top of page

سورة الإخلاص 

 

 

بِسْمِ اللَّـهِ الرَّحْمَـٰنِ الرَّحِيمِ  

 

 

﴾۱﴿  قُلْ هُوَ اللَّـهُ أَحَدٌ 

​

 

 

​

 

Суратул Иххласс 112. 

 

I. Дуцца абе МухIаммад, мун маххссароде гьавун дуда гьикъардулел мушриказда: «Дицца жиндие лагълъи гьабулев дир БетIергьан Аллагь вуго жив цогояв, жиндие щивго гIахьалчи гьечIев, жинда релълъарав цоги Аллагьги гьечIев. 

​

 

 

﴾ ۲ ﴿ اللَّـهُ الصَّمَدُ  

 

 

 

2. Жив щибго жоялда хIажатав гьечIев, кинабго маххлукъ щибаб лахIзаталълъ жинда хIажатав Аллагь вуго гьев. Жинда тIадеххун щивго хан гьечIев, жинда ващадавги гьечIев. 

​

 

 

 

 

﴾۳﴿  لَمْ يَلِدْ وَلَمْ يُولَدْ   

 

 

 

3. Жиндие лъимер гьечIев. Жиндир хъизан гьечIев, жив гьезда хIажатавги гьечIев. Жив цоги чияссул лъимерлъунги гьечIев. Жиндир ватиналълъе авал гьечIев вуго гьев Аллагь. 

​

 

 

 

﴾۴ ﴿ وَلَمْ يَكُن لَّهُ كُفُوًا أَحَدٌ  

 

 

 

4. Гьев Аллагьассдеххун бащалъи гьабулев, гьессда релълъарав, гьессул гIадаб гьунар-къуват бугев щивго чиги гьечIо. Жинцца жо бижунев, жинцца хьихьулев, жинцца хвезе гьарун аххираталда тIадги рахъине гьарулев гьаб кинабго маххлукъалълъул жив цогояв Ххаликъ вуго гьев Аллагь. Аллагьу Акбар.

​

 

Гьаб сурат буго Аллагь цо гьавиялълъул бицунеб жиб къокъаб, ама магIна камилаб сурат. Аллагьассул ссвалат салам лъеяв аварагасс абуна: «Къул гьуваллагьу ахIад» жинцца цIцIаларав чи Къураналълъул лъабго бутIа гьабун цо бутIа цIцIаларав чияссда релълъун вуго» - абун. Гьеб хIадисалълъул мурад буго: Къуръаналда жаниб бицунеб жо лъабго батIияб хIукмуялда ххурххараб букIин: Аллагь цо гьави, шаргIиял хIукмаби рици, ццерессел уматузал ххабар бици. Гьаб сурат Аллагь цо гьави жинцца бицунеб бугелълъул, гьеб буголъана Къурьаналълъул лъабил бутIаялда релълъун. 

​

 

Сасикьа ГIабдурахIимицца буссинабураб Къуръан тапсиралдасса 

​

​

bottom of page