top of page

ТI T

1. ТIабкIиниб ххинкI букIаго, ххарбиде вуссунарев,

    Хъабиниб рахь букIаго, гъуд кодосса биччачIев.

2. ТIавус зодобе боржуна, гIункIкI ракьулIе лIугьуна.

3. ТIавус тIавусалда цадахъ, гъеду гъадида цадахъ.

4. ТIагъур бахъеян витIани, бетIер къотIун вачIунев.

5. ТIагъур баччизе гуребила бетIер бижараб, ургъизейила.

6. ТIагъур лъунщинав чи вукIунаро, чоххтIо къанщинай чIчIужу йикIунаро.

7. ТIагъур цIун хьаралълъусса тIагъур цIураб гурони бачIинчIо.

8. ТIагIам гьечIеб квен, цIцIам банилан, тIагIамлъиларо.

9. ТIад базегIан чIвадан букIараб батани, тIад бан ххадуб рукъ лIугьунеб.

10. ТIад гьабураб куйдасса кодобе кьураб хIоржого лълъикI.

11. ТIад гьир лъезе къваригIараб меххалълъ, хIамида кьабуларебила, кьинкΙулебила.

12. ТIад квер бахъани, катицца нилIее маргьа бицуна, течIони, хъарссула.

13. ТIад налъи ккун, чи рихунгеги, чед тIагIун, гьобол рихунгеги.

14. ТIад рекIараб чол квелълъ кквезеги лъазе кколебила.

15. ТIадаб гуреб гьабуни, гьабизе кколеб бегулеб.

16. ТIадагьаб чвантидасса бакIаб гьир гьечIеб.

17. ТIадго арав гьоболги лълъикIго кьолеб микьирги.

Абиялълъе кьучIчI лъун буго микьир бичизе чияр росулIе арав Ххирада тIассан. Гьеб росдал реэдиялълъул, хIурмат гьабун кIалъаялълъул рагIи букIун буго “ххира”. Цо-цояз, ххассго херал руччабаз, гьикъулеб букIун буго, микьир кин кьолеб, дир ххирайилан. Ххираццаги “жив лъалел гIадамазе” микьир чIобого кьолеб букIун буго.

Гьанже гьаб аби хIалтIизабула, нилIецца гьабураб гIаданлъи гIадаллъилъунги рикIкIун, нилI кваназе цоги хIалихьатав чи лIугьараб меххалълъ.

18. ТIадго кквечIев цIцIогьор гурев.

19. ТIаде валагьарассе – рахъу, бухъулессе – хъиру.

20. ТIаде гьобол къотIугеги, гьабихъе нух къосунгеги.

21. ТIаде къо ккани, къоркъолги бацI лIугьунеб.

22. ТIаде къо ккезегIан кIалалълъ гьури кколаресс, тIаде къо ккараб меххалълъ, горбода бетIер кколареб.

23. ТIаде лълъим бачIунареб хIор ххеххгого къунеб.

24. ТIаде хъвачIого, ракьалдасса чияссул хIал хьоларебила.

25. ТIаде цоги гъеду бачIани, гъоркь букIараб боржунеб гIадат.

26. ТIаде цIцIанагIан гIемерлъулебги ургъел, тIасса бачахъанагIан дагьлъун унебги ургъел.

27. ТIаде чи лъаларила, чараб гьой лъаларила (гьабулеб ишалълъе ххеххлъи гьабейила...).

28. ТIадегIан ругезул хIурмат лълъиццаго цIунулебила, хIурмат цIунейила гъоркьегIан ругезулги.

29. ТIадежоялъила мискинчи чIвалев.

30. ТIадлъи милк гуро.

31. ТIаждал хвах бихъун толев, тIаргъида рукъи балев.

32. ТIажуги ретIунилан, тIагъурги лъунилан, бихьинчи лIугьунарев.

33. ТIаладухъа гъоркье гIарац баниги, чIчIужуялълъ кквечIеб рукъ бечелъулареб.

34. ТIалил найицца гIадин, дуццагоги кваназе, чияеги кьезе гьабе дуниял.

35. ТIамах гъунилан, гъветI бакъвалареб.

36. ТIансса ссурмияй, салмаг гвангъарай.

37. ТIанчIи ругеб гъадие гъоссол бутIа щолареб.

38. ТIанчIиги гьарила квешав чиясс, ханалги гьарила.

39. ТIанчIиги ханалги гьарулел ратила.

ГIурус тIаде бахараб, гьез магIарухъе болъонги бачун бачIараб заман букIун буго. МагIарулал кидаго жидеда бихьичIеб хIайваналда тамашалъун рукIун руго. Цоясс цогияссда гьикъун буго - “ТIанчIидай гьалълъ гьарула, ханалдай?” Дандеясс жаваб кьун буго -

- Куц лълъикIаб гьечIо, тIанчIиги гьарулел ратила, ханалги гьарулел ратила.

Гьессали тIанчIиги ханалги гьарилаян, магIарулазда гьоркьоб гьаб аби квешав чияссул хIакъалълъулI хIалтIизабула.

40. ТIанчIил гьоцIцIо гьуинабила.

41. ТIаргъил борххалъиялълъ гуребила чияссул тIадегIанлъи борцунеб.

42. ТIарцIцIаб куялдасса керчаб гьой лълъикIаб.

– ТIасса лIугьа! Дур букIин лъарабани, бикъилароан!

– ВахI, дир букIинни лъан батиларин, дурго гуреблъигIагийищ лъачIеб?

43. ТIассан бараб рукъи тIассан ххолеб.

44. ТIахьал гIабдалзабазе гурелила хъвалел.

45. ТIегь балареб гъотIоде наялги руссунарел.

46. ТIегь батани, тIун чияе кье, гIагIа батани, чияда бихьилалде, тIаде ракь хъвай.

47. ТIегь гIемералдасса гъветI тIамах гIемераб лълъикIаб.

48. ТIегь гIурдада берцинаб.

49. ТIегьги ххерги бижилалде, лълъимги ракги бижарабила.

50. ТIегьалареб гъотIода пихъ бижулареб.

51. ТIекъав, тIикъвамагIал чIваниги, хъущтIулев.

52. ТIекъалда тIад рекъоге, къурассде вортанхъуге.

53. ТIекълъи ккедал абула илбисалълъ батилилан, кицини букIуна мунго дуццагойилан.

54. ТIелекье ГIалибулат гIадин.

ГIалибулат вукIун вуго ххунздерил наибассул нукар. Цо къоялълъ наибасс ГIалибулатида абун буго метер мун ТIелекье ине кколилан. Щай витIулев вугевали бицун букIун гьечIо. Нахъиссеб къоялълъ радакь вахъун арав ГIалибулат, ТIелекьеги щун, наиб вегаралълъусса вахъиналде Ххунзахъе тIад вуссун вуго.

55. ТIепалодул щибаб мугьалда бугебила алипалълъул ххатIги гIетIул тIириги.

56. ТIеренаб бакI бихьунила кварги тIолеб.

57. ТIеренаб хьвацIцIил щулалъиялдасса цIунаги.

58. ТIеренлълъеда – лълъетIахъан, шагьра нухда – палугьан.

59. ТIехх кьурасс чехь бихъана, чед кьурасс бер бахъана.

60. ТIехI бараб ябуялда лIулIадулеб батунилан, таманчаги речIчIун, гIандиссесс жиндирго чу чIварабила.

61. ТIехI барассе рас кисса, гIи гьечIессе квас кисса?

62. ТIехІасс тIагъур хъубухъулеб, тIадерахъи баралълъ гьумер баххчулеб.

63. ТIидул ххинкIал гьаруге, гьацIцIулIе цIцIам тIамуге.

64. ТIил – мугъалда, рагIи – бадибе (ТIил мугъалда лълъикIабила, рагIи бадибе лълъикIабила).

65. ТIилал махI бахъинабичIого, катицца рахь толареб.

66. ТIилихъ къали кьурабила, гъалдибералълъухъ рикьи кьурабила.

– Аб тIил щай, гIундулххалат, гьадигIан ххираго босараб?

– ТIил гьечIого, дун тIубаларо. Гъалдибер гьечIониги, гьирихъ хъвадизе бегьула.

67. ТIимугъ ххинаб бокьун, чахъаби рихун.

68. ТIинаб кIодо гьабуге, ккечIеб тIаде босуге.

69. ТIингъида рукъи къохьол рекъола.

70. ТIингъилI векьарани, гордилI лъилъарула.

71. ТIину гьечIеб гьагьинире гьарудуге.

72. ТIирикI-тIирикIан ракI бугев мун, рекIетIа саву ккарай дун.

73. ТIирун чIчIани, чияссе мегIерги мутIигIлъулеб.

74. ТIогьоде хьвадулареб найицца гьоцIцIо гьабулареб.

75. ТIогьол цIураб авлахъалдасса ракул цIураб бокьобе хIайвангицин буссуна, гьундузухъе мун щай вуссунарев?

76. ТIогьолI на гIадавги вукIуневила чи, наязда гъорлI кьужна гIадавги вукIуневила.

77. ТIокъо-къоноялълъ жаниве вачарав чи чанги вукIунев.

78. ТIокIаб боцIцIуцца бер бахъулареб.

79. ТIокIабги дуе гьобо базе бакIищила къваригIун бугеб? (щиб кьуниги, щиб гьабуниги гIоларев чияссде).

80. ТIоларев гьудулассда бихIунареб рагIи абуге.

81. ТIолго дунял ссверана, алжан рокъоб батана.

82. ТIологIи бахъулессе – лахI, хIажатххан бахъулессе – махI.

83. ТIом чIартилав, ракI квасулав.

84. ТIоноцIцI букаригун, наку хъассуге.

85. ТIор бищун, мугь кванан, жий йиццалъарай,

 Налъи бецIулаго, жий тIеренлъарай.

86. ТIор бакIлъани, гIодобе къулула, чи бечелъани, эххеде валагьула.

87. ТIор чIобогояб хIалухъин ххалатаб букIуна, бетIер чIобогояв чи чIухIарав вукIуна.

88. ТIоралда тIор лъуни, гул лIугьуна.

89. ТIотIода хъублъи батула, найида тIегь батула.

90. ТIотIоде гIарада кьвагьулареб.

91. ТIотIоцца малал ран, на букIинаро, ихдал гъотIодасса тIегь босичIого.

92. ТIох борлIун баниги, гIолареб гIарац!

93. ТIохда гьоло гурев, гьоцIцIиб лал гурев.

94. ТIохде рахине кIкIухIалал рохьоре ине ккола.

95. ТIоххол гьоболассдассаги тIоге, гьанал гIагарлъиялдассаги тIоге.

96. ТIохIол цIураб бетIер букаричIого букIинищила.

97. ТIохIоцца бетIер квараб хIамида щайила божулев, гIазугIан бетIер хъахIлъарав жинда щайила божулареван абурабила Мала Нассрудиницца мадугьалассда.

ТIоццебе тамашаяблъун букIунеб жо нахъа гIадатлъун лIугьун унеб.

ТIоццебессеб рахъида барабила букIунеб хурул (рекьул) берцинлъи.

ТIоццебессеб соналълъ бугIаги хIунчулей, кIиабилеб соналълъ гьолоцин хIунчуларей (ЦIидалълъго раса-цIцIалкIу – магIида).

Аби буго цIияй бахIаралълъул хIакъалълъулI.

МагIарулазул гIадат букIана бекьулаго пурццихъа тIад ххутIараб гьоло тIилицца хIунчулеб, тIил тункун баххчизабулеб. Гьаб кици хIалтIизабула нусал, тIоццере гIадин, нахъа цIакъал рукIунарилан абураб магIнаялда.

98. ТIоццее гьаюрай яс – ццудун бекьараб пурчIина.

99. ТIоццее ячаралда рекъечIевила, кIиабизе ячаралда рекъечIевила, анцIила цоабизе ячарай бищунго къадарай хьихьизе ккарайила.

100. ТIоццеессей чIчIужу – Аллагьасс кьурай, кIиабилей – чияцца кьурай, лъабабилей – щайтIаналълъ кьурай.

 ТIорщел оцонибе бай.

Мадугьаласс мадугьалассда гьарарабила лалде оц биччаян. Ссвакван бугилан гьесс биччачIебила. Цо къоялълъ оц биччачIев мадугьалги вачIаравила гьав цояссда асскIове, тIорщел базе къандалъо кьеян гьарун. Ассги абурабила оцонибе баян.

Гьалълъул цоги бицуниб куцал руго - «АбухIанипацца хIама биччачIони, ХIанукацца оц биччаларо», «МалахIосен ахIарав ахIе, ХIункърае кьурассе кье», «Аниссан бохх бегьичIони, боххссан ратIа бегьуларо», «Далалда гъоркь абизе лъараб гIадин, мималда тIад абизеги лъазе ккола».

101. ТIорщел цIуна-къай, царгъиниб гъвар-гъвари бахъиналде, гIарац цIуна-къай, чвантиниб гьури бахъиналде.

102. ТIуралълъубе лълъим унеб, чIваралълъубе магI унеб.

103. «ТIура!» – ян гIанкIкIида, «Гьа!» – ян царада.

104. ТIуркIуларев гурони бергьунарев.

105. ТIурун унеб царал рачIчI сабаблъунги кколебила гьудул-гьалмагълъиялда гьоркьоб дагIба-къецц.

Тира-ссверизе вахъарав киго гьалмагъассда цер бихьанила. Цояв гьалмагъасс цер хIинкъизе гьаракь гьабунила. ХIинкъараб цер, бекерухъе лъарги кIанцIун, тIурун анила.

Гьалмагъасс гIажаиблъи гьабунила гIебаб лъар царада кIанцIизе кIвеялда. Цогияв гьалмагъасс абунила, кIанцIизеяли кIанцIанин гьеб, лъарални доб рагIалде щолаго, гьелълъул рачIчI лълъадалI ччунилан. Валлагь, ччунилан ав, валлагь ччучIилан дов, лълъикIабго дагIба-къецц кканила гьезда гьоркьоб. Гьеб сабаблъун ракIхвейгицин кканила.

Анила чанго сон. Цо гIодорчIчIеялда гьазул цояссда ракIалде щванила доб царал рачIчI сабаблъун гьазда гьоркьоб ккараб дагIба-къецц. Дандеясс абунила, валагьин, кигIан дуе бокьаниги бокьичIониги, доб лъар кIанцIулелълъул царал рачIчI лълъеда хъван букIанилан. Ав жиндирабго ккун чIчIанила, тIарамагъадаги, цIидассан цоцазулгун ракIалги хун, ратIалъанила гьалмагъзаби.

106. ТIутI батани, боржа, чIчIетI батани, кIанцIе.

107. ТIутIалги тIаделъугеги гIемерал жал.

bottom of page