top of page

З #

  1.  Загьруги лъазабе, гьекъечIого тезе.

  2.  ЗагIигIоралълъги хисулебила жиндирго чваххи.

  3.  ЗагIипассде къавукъунге, къадарав чияссулгун хоноги чIваге.

  4.  Заз баккудассагойила бегIераб букIунеб.

  5.  Заз бекьани, заз бижулеб, унти бекьани, толо бижулеб.

  6.  Заз, къарассда гурони, унтулареб.

  7.  Заз лълъикIабани, заз къине гьабилароан.

  8.  Залим бетIерлъун тани, бол зигара цIцIикIкIуна.

  9.  Залимассе залим гъежда чIчIун ватулевила.

  10.  Заман букIунебила гIадамазул илбисал лIугьунебги илбисазул гIадамал лIугьунебги.

  11.  Заман букIуна боз щоларебги, заман бачIуна дарай гIоларебги.

  12.  Заман щвелалде барщараб пихъ ххеххго турула.

  13.  Заман щвелалде гIегIедараб хIелкил бетIер къотIейила.

  14.  Заман щвелалдего чIчIичIчIидичIого, дурго рагIадалълъухъ балагьун, кIалъай.

  15.  Заманалда бекье, заманалда бакIаре.

  16.  Заманалда бубудичIогойила бугъа, гIодобги тIамун, хъураб.

  17.  Заманалда гьабичIеб гьабичIого ххутIулебила.

  18.  Заманалда рекъонила хьвадизе кколел.

  19.  Заманалълъ чи квегъула, рукьалцца оц квегъула.

  20.  Заназда кьурдуге, майданалда кьурде.

  21.  Зар билани, питначияссул гъванщида нахъа батулебила.

  22.  Зар кьабун, чи холаро, цин-цинни гьелълъ хвалде рачуна.

  23.  ЗахIмат – бечедаб, хIалхьи – мискинаб.

  24. ЗахIмат бихьичIого, мухь Аллагьассги кьолареб.

  25.  ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарасс бекьичIого лъилъе, нилI гьечIого, хур.

  26.  ЗахIмат бихьичIого рахIат букIунареб.

  27.  ЗахIмат бихьичIого щвараб боцIцIуцца чи гьалаг гьавула.

  28.  ЗахIмат бихьун – дуниял, гIамал бихьун – аххират.

  29.  ЗахIмат гьечIого, хуриб тIор баларо.

  30.  ЗахIматаб хIалтIиги хIалихьатаб тIеххги – дурццассе.

  31.  ЗахIматаб – ццебе, бигьаяб – ххадуб.

  32.  ЗахIматалълъ цагъур цIола, цагърицца рукъзал рала.

  33.  ЗахIматалълъ чи хьихьула, кIкIвахIалълъ хвезе гьавула.

  34.  Зигара мадугьалассда базе бигьаяб жойила.

  35.  Зигараялълъеги рахьиялълъеги кватIи букIунареб.

  36.  Зоб бихьарассда ракь бихьулеб, дуниял бихьарассда хвел  бихьулеб.

  37.  Зоб гъугъанщинахъе цIцIад балареб.

  38.  Зоб гъугъачIони, гьаракь бахъунареб, гьури бахъинчIони, гIучI бегулареб.

  39.  Зоб гIемер гъугъадани, цIцIад дагьаб бала.

  40.  Зоб роцIцIадго балеб аххир гьечIеб цIцIад, нилI рацIцIадго лъолел хъубал бугьтанал.

  41.  Зоб ццебе бихьарассда ракьги ццебе бихьаги.

  42.  Зобалазда кьвагьараб ракьалда тIатарабила.

  43.  Зобгун ракь рекъаги, цIцIадгун бакъ рекъаги.

  44.  Зодиб цIцIер бугони, ракъдада квач букIунеб.

  45.  Зодибе мали чIвалареб, ралъдадассан кьо лъолареб.

  46.  Зодоб бугеб тIавусалдасса кодобе щвараб къадакого лълъикIила.

  47.  Зодоб бугеб цIцIумалдасса гIодоб бугеб чIоролого лълъикIила.

  48.  Зодове валагьуге, гIодове валагье.

  49.  Зодоссан рахIмат кьеги, гIодоссан баркат кьеги.

  50.  Зулму гьабуге: мун кьижун вукIуна, дуцца зулму гьабурав ворчIун вукIуна.

  51.  Зулмучияссда зулмучи гъеждассан ваккун вукIуневила.

  52.  Зулмучияссул гIумру къокъаб.

ЦIцIудуда гьикъарабила дуцца чан сон барабилан. Гьелълъ жаваб кьурабила лъабкъого сон банилан.

Гьеб рагIарасс гIажаиблъи гьабурабила: зулмучияссги гьебгощинаб заман ракьалда тIад щиб гьабун балеб жойила букIунеб.

 

  1.  Зулмуялълъул си борххалъанагIан, гьенисса вортарассул бохх цIцIикIкIун бекула.

  2.  Зурмихъан берталълъе гIедегIулевила, дибир хвалил рокъове гIедегIулевила.

  3.  Зурма рекъезе – къали, кечI рекъезе – далай.

bottom of page