top of page

Щ &

1. ЩагIил рекелалда чIулгIи бекуге.

2. ЩагIицца берал ссурай, ссуркIицца кIал бахъарай.

3. Щай нилIедего кколареб хIалтIи бетIералде босизеян абурабила гъадицца хIамида.

- Дуда лъалищ, дир гьудул гъеду, дицца мал бани, гьаб дуниял щущан унеблъи? – ян абунила хIамицца.

- Лъала, – ян абунила гьадицца, –  щущарабни гьеб бакIа-баххаризе нилIедего ккелахха.

- Валагь, битIун буго, – ян абунила, гьаругьин боххги гIодобе биччалого, хIамицца. – Щай нилIее кколареб хIалтIи бетIералде босизе?

4. ЩайтIаналда кIалдиб гьецIцIо къаги.

5. Щакаб гьабуге, хIакъаб гьабе.

6. Щакав кквечIони, хIакъав щоларо.

7. Щаклъиялълъул рагIад ккараб рекIелI ралъадгIанаб щайтIан бижулебила.

8. Щар чIвани, нах бахъулеб, нах чIвани, гIетI баккулеб.

9. Щаялълъе гIила щайго.

10. Щвараб гIор гьукъизе лIугьунге.

11. Щвараб гIоралдассаги цIунаги, гIурай ясалдассаги цIунаги.

12. Щваралда щвезе бугеб релълъунареб.

13. Щведал хIалтIи гьабе, ккедал хIалхьи гьабе.

14. ЩвечIеб-цIечIеб хьон хьани, хуриб жо бижуларо.

15. Щиб бихьаниги, чIчIегIераб къо бихьугеги.

16. Щиб бихьаниги, эбелаб рухIел бихьугегийила.

Цо гIаданалълъ, щиб къварилъи къавулI рещтIаниги, я Аллагьин, эбелаб рухIел бихьизе хъван батугегиян гьарулаанила.

Хванила гьелълъул вацц, хванила яс. Зигара банщиназда гьелълъ, щибинхха гьабилеб Аллагьассул къадаралда, эбелаб рухIелгIаги бихьизе хъван батугегийилан абулеб букIанила. Цо зигара базе ячIарай гIаданалълъ гьелда абунила: вахIин, дур эбел-эменги хванин, ваццги хванин, гьанже ясги хун йигин, гьелдасса кIудиябгийищин рухIел букIунеб?

АсскIоб букIараб ссанкIидаги кIутIун, гьелълъ абунила букIунин, гьелдасса кIудиябги рухIел букIунин! Инсанасс, кигIан кIудияб бихьаниги, рухIел хIехьолин, гьаб эбелхвад-сандукIни чIобоголъи лълъиццаниги хIехьоларилан. Гьеб чIобоголъи кколила бищунго кIудияб - эбелаб рухIел.

17. Щиб гьабизе кколебали лъалел гIемерал ратулел, кин гьабизе кколебали лъалел дагьал ратулел.

18. Щиб гьабилебан гьикъани, щайтIан боххулебила.

19. Щиб гьабун щваниги щибин гIиялълъажоян абулебила бацIицца.

20. Щиб квананиги щибин гIорцIцIаралдасса нахъеян абурабила ГарцIцIихIунисеницца.

Мискинчи ГарцIцIихIусен, хIамида куракул чIагьалги лъун, гьеб бичизе Щураве хьвадулев вукIун вуго. ТIад вуссун вачIунаго, ШишиликI магIарда цо лълъим бугеб бакIалда кваназеги лъалхъулев вукIун вуго. Ххулжинисса къватIибе бахъулеб букIун буго тIоххол цIураб гьитIинабго таргьаги, цIулал щурунги, балухъги. Щурминибе тIеххги бан, тIаде лълъимги тIун, багъаризеги багъарун, хIохь бачIого, боркIун балагьизабулеб букIун буго. Ххадубго цун АлхIамдулиллагьиланги абулеб букIун буго. Цадахъ рукIаразда ххаллъун буго гьеб. Гьез ГарцIцIихIусенида цIеххон буго кигIан ххеххгогIагийин мун гIорцIцIулевилан. Гьесс жаваб кьун буго - «Валлагь, гIорцIцIанахха, пачаяссда бащад квананахха дун», – ан. Гьелълъул магIна бичIчIичIел нухлулаз нахъеги такрар гьабун буго суал. ГарцIцIихIусеницца абун буго - «Пачаги кванала гIорцIцIизегIан, дунги кванала гIорцIцIизегІан. Щиб квананиги щиб, гІорцIцIаралдасса нахъе».

21. Щиб кварабан гьикъулареб, щиб ретIарабилан гурони.

22. Щиб лъаниги, лъараб жоялълъул зарал гьечIеб.

23. Щибаб жоялълъе гIурхъи бугеб, гIорхъолIа борчIараб жо – гIадада хвараб жо.

24. Щибаб жоялълъул ххеххлъи заман анагIан дагьлъула, херлъиялълъул ххеххлъи заман анагIан цIцIикIкIуна.

25. Щибаб заманалълъул балъ батIияб, щибаб гIаламалълъул гIадат батIияб.

26. Щибаб ишалълъе жиндир заман букIунебила.

Цо нухалълъ цIцIаларав чи КъурбангIалихъе ячIун йиго херай гIадан. Гьелълъ гьарун буго жинда как базе малълъейилан.

ЦIцIаларав чиясс гьей алхIам цIцIализе тIамун йиго. Хералълъ гьеб цIакъ загIипго, щибниги бичIчIулареб куцалълъ цIцIалун буго. КъурбангIалицца гьелда абун буго -

- Дуцца алхIам лълъикI цIцIалана. Дуе гьеб цIцIали гIунги тIокIаб буго.

Гьей херай арайго, чIчIужуялълъ КъурбангIалида гьикъун буго -

- Щай дуцца долда как базе малълъичIеб? Бегьулебищ цIцIаларав чиясс гьедин гьабизе?

- Бегьула, – ян жаваб кьун буго КъурбангIалицца. – ХерлъизегIан базе лъачIеб какги гьанжеялдасса ххадубги гьелда, кин малълъаниги, лъаларо. Щибаб ишалълъе жиндир заман букIуна.

– Щибаб къоялълъ жиндие нусго томеналълъул зарал буго, – ян абурабила Мала Нассрудиницца.

–Щай?

–Щайгурелълъул, гьечIого.

27. Щибаб къоялълъ квананани, гьоцIцIоги кьогIлъулебила.

28. Щибаб къоялълъ тIаде бачIунареб лъай – тIину багьараб хIор.

29. Щибаб росулI цо-цо рукъ бай (щибаб росулI гьобол гьаве).

30. Щибаб рукъалълъул къибла батIияб.

31. Щибаб рукъалълъул – цо-цо гIадат, щивав чияссул – цо-цо гIамал.

32. Щибаб ххарил сум жиндирго кьибилалдассанила бижулеб.

33. Щибго гуреб марга буго дуниял, бихьизеги кьолеб, кьурун бахъулеб.

34. Щибго гьабизеги, зоб роцIцIун ххутIагиян абурабила цIцIад гьаризе рахъарал сахъадерил цоясс.

35. Щибго гIила гьечIого, ГIаща къачIадиларо.

36. Щибдай босилаян ургъилалде, цин чвантиниве вакке.

37. Щивав чи – жиндирго рукъалълъул ххан.

38. Щивав чияссе букIунеб цо рекъолеб мацIцI, щибаб унтуе букIунеб цо рекъолеб дару.

39. Щивав чияссе – цо-цо ургъел, гьабигьанассе – лълъел  ургъел.

40. Щивав чияссул жинди-жиндир рикъзиялълъул раххасс бугебила зодосса гъоркье далараб, аххадасса къотIичIони, тIаде бачIунареб.

41. Щивав чияссул къоло ункъо гIайиб букIунебила, бищунго чияе ссурараб жиндаго берцинги бихьулебила.

42. Щивав чияссул кIиго рачел бугеб, цояб чучаниги, чилъи холеб.

43. ЩигатгIанаб боцIцIуе ратIалгIанав бетIергьанчи къваригIунев.

44. Щолареб бокьугеги, бокьулареб щогеги.

45. Щоларебила гъадихъе мокъокъ, щун ххадуб хIамалъун кьололебила, чулъун рекIунебила.

46. Щолеб жо дагь буго, гьардохъаби гIемер руго.

47. Щолелълъубе щвечIого, лълъим чIчIолареб.

48. Щокъроссан инчIеб жо ургьибе щоларебила.

49. Щуго жо гьечIебани, гIадамал лълъикIал рукIинаанила - жагьиллъи, хьулхьуди, баххиллъи, рецц-бакъ бокъи, жиндирго гIунгутIи жиндаго берцин бихьи.

50. Щуго килищ биччан тани, тамахаб хъат букIуна, щуябго данде къани, къвакIараб зар лIугьуна.

- Лъимал! – ан абун буго херасс жиндирго васазда. – Гьаб хьопол гул кинассда бекизе кIолебали бихьея нужецца.

Херассул щуявго вас иргадал къеркьаниги, гул бекизе кIун гьечIо. Цинги херасс гул бичун буго.

- Гьанже гъуре гьал, – ан нахъеги лъималазда ццере реххун руго. Лъималаз хьопал бигьаго гъурун руго.

- Гьелехха, дир лъимал, – ан абун буго херасс, гьадаб кициги тIамун, – дун хвараб меххалълъ цоцаздасса ратIалъун чIчIани, нуж чиякьа къезе руго. Цолъун, цоцаз ккун чIчIани, бергьенлъи нужехъ букIине буго.

51. Щуго тIагъур бараб инссул магIида ицицца кванараб кулъун бан буго.

52. ЩудукIай хъарт гурейила, хъарт ЩудукIай гурейила.

53. Щулияб хъалаялдасса щулияб гьудуллъи лълъикIаб.

54. Щун тун тараб кIодолъи! ГьечIеб кодоб-хъатикь жо!

55. Щура инарал чIвазеги бегьула, нахъани квеш ккола.

56. Щурункъверкъалдассаги квас бетIулев.

57. Щурункъоркъол тIомода рас балагьуге, гIанкIкIил бетIералда лIурдул ралагьуге.

bottom of page