top of page

Результаты поиска

2069 results found with an empty search

  • Хӏожоги Гуржиявги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    УНССОКОЛОССА ХIОЖОГИ ГУРЖИЯВГИ (Ххалкъияб ххабар) НекIо заманаялълъ магIарулал давладе хьвадулел рукIун руго. ГIемериссел гьел Гуржиялълъе унел рукIун руго. Цо нухалълъ Унссоколосса ХIожо абурав чи ун вуго гьениве давла гъабизе. Щибниги жоги щвечIого, гьасс гуржиязул цо гьитIинав васс викъун, жиндаго цадахъ Унссоколове вачун вуго. Жиндирго лъималги рукIинчIого гьасс гьав жиндиего васлъун тун вуго. Вас кIудияв гIун, гIолохъанчи лIугьун вуго. Гьав кIудияв гIунагIан гьессул жиндирго ватIаналдеххун ххиялал гIемер кколел рукIун руго. ГьитIинаб меххалълъ живго вукIарав рукIа-рахъин, эбел-эмен, росу-ракь: ццебесса унеб букIун гьечIо гьассда даим. КигIан цIакъ вокьун ХIожоцца хьихьулев вукIаниги, ракI Гуржиялдеххун цIцIалеб букIун буго. ХIожо щаклъун вуго гьассда. Къойидасса къойиде вас пашманлъулев вихьараб меххалълъ, ХIожоцца цо нухалълъ ахIун, гьикъун буго гьассда: – Я, дир вас, мун дида гьаб заманаялълъ пашманго вихьулев вуго, щиб дуда ракIалда бугеб жо, дуе бокьараб жо щиб? Дуе бокьараб жо гьабизе буго дицца, бице дурго, – ян. – Дуцца, дир эмен, дун гIезегIан берцингоги хьихьулев вуго, дие щибниги гьаниб камураб жоги гьечIо, кигIан кин бугониги дун ватIаналълъ цIцIалев вуго, ватIаналълъ дие рахIат толеб гьечIо. Дур ракI унтилебан дудаги абизе кIоларого, дир ракI унтун, дидаги хIехьезе кIоларого вукIана дун. Гьанже дуцца цIеххедал бицинчIого тезе бегьичIо. Виччай дуцца дун инссул росулIе, – ян бицанила васасс. ХIожоцца цIакъ пикру гьабунила васасс бицараб жоялълъул, цIакъ кIудияб ургъел кканила гьассда. Гьадинаб пикруялълъ букIанила гьассул ургьимесс бухIулеб: – Диего гьавурав васгIан дие гьав вокьулев, гьассие бокьараб жо гьабичIони, ракIалълъ толарев, гьадигIан ине бокьарав кин гьав чIчIезавилев, гьассдасса ватIалъун кин дун вукIинев? Аххир хIукму гьабунила ХIожоцца: «Васассе бокьараб жо дицца нахъчIваларо. Таваккал! Гуржиялълъ дир вас вугингIаги вукIина ракI парахатлъиялълъе». ХIожоцца чу-ярагъ, ретIел-тIеххги къачIан, вас нухда лъунила. Вас ун дагъабго заманалдассан ХIожое вас гьавунила, жеги дагьабго заманалдассан живго ХIожоги хванила. Гьессул хIурмат гьабун, васассда ХIожо абураб цIцIар лъунила. ХIассил, васассда ХIожол ХIожоян абулеб букIун буго. МоцIцIал анила, сонал анила, ХIожол ХIожо гIун вачIунев вукIанила. Гуржиялълъе чабхъаде хьвадун-руссун, хьвадун-руссун росдал багьардурзабиги рукIанила. Рокъоб букIа, къватIиб годекIаниб букIа, жибго чабхъадул бицун, давладул бицун рукIунел рукIанила гIадамал. БахIарчилъи гьабурассул цIцIар гьабулеб букIун буго, къадарлъи бихьарав ссуризавулев вукIун вуго. Росу рагIалде майданалде рахъун чуязда гьунарал гьаризе ругьунлъулел, гIужда туманкI речIчIизе, ххвалчен хьвагIизе ругьунлъулел рукIун руго. ХIожол ХIожоццаги хIаракат гьабулеб букIун буго ххеххгого жиндасса кIудияз гьабулеб батараб гьабизе ругьунлъизе. Рокъоб эбелалълъги бицунеб букIун буго гьассда эмен давладе хьвадулев вукIараб куцалълъул, Гуржиялълъ вас вукIиналълъул. ХIассил, гьассул ракI чабхъаде иналълъул пикруялда букIун буго. Цо нухалълъ къачIадун руго росдал гIолохъаби чабхъаде ине. ХIожол ХIожоцца абунила гьезда: – Бегьиларищ нужеда цадахъ дунги вачIине? – ян абун. – Угь, гьасс бицунеб жоялълъухъ балагье, мун гIадинал гIиссинал чагIи гьенире кин унел? Щиб дуцца гьениб гьабун бажарилеб жого? Рокъов чIчIа, гьудул, кIваричIин дуе чабхъенго. – Бугониги дун нужеда цадахъ вачIине къачIала, – янги абун, гьасс рокъовеги вилълъун хIадурлъи гьабун буго. Эбелги гьедигIан данде чIчIун. гьечIо гьассда, щайин абуни, доб заманаялълъ гьеб цIакъ билълъараб жо букIун буго. – Гьав ХIожол ХIожо нилIеда цадахъ вилълъани, нилIее нухда гьассул квалквал гуреб тIокIаб жо ккеларо, рачIа гьав вагъа-вашаризегIан нилI ххеххго рахъун, гьаб ракь тезин, – абураб хIукму гьабунила гIолохъабаз. Ихдалил къоялъ хъахIлъи балелдего анссадерил гIолохъабазул гьитIинабго къокъаялълъ росу танила. Радал вахъаравго ХIожол ХIожо къачIан чу-ярагъгун, эбелалълъе къо-мехх лълъикI гьабун, рекIун, кьабун чода цIцIалгун къватIиве вахъанила. Балагьанила, ун ругила гьалмагъзаби гьавги тун. Гьаб жо квеш рекIедаги унтун, ццимги бахъун, кьабизабунила гьасс гьазда ххадуб. Бер рукIкIиналде гIазул мугIрузул ракьанда къайиги чIван, сордо базе рещтIараб анссадерил къукъаялде тIаде кканила гьав. – Ассалам гIалайкум гIолохъаби! – ВагIалайкум салам, рещтIа! – РещтIинаро, нужеда цадахъ рещтIине бокьун букIарабани, нуж дунги тун инароан. ХIожол ХIожоцца ХIожол цIцIар гIодоб толареблъи лъай нужеда, – абураб рагIиги реххун, ХIожо довегIанги ун, хIатIихьен бан чуги биччан, живго цохIо къайиги чIван чIчIун вуго. Радал бахъун, къокъа ун буго цояб рахъалдеххун балагьун, ХIожол ХIожо ун вуго цояб рахъалдеххун балагьун. Гуржиязул мугIрузда терелевги вукIун, аххир цо бакIалда ХIожол ХIожода цо гIулбузул илхъи бихьун буго. РачIа дицца гьаб илхъи хъамун бажаруларищали бихьизин абураб жо ракIалде ккун буго гьассда. Лъабго-ункъо илхъичиги ватун, кьвагьи-гIанхъиги ккун, ХIожол ХIожо лIукъ-лIукъун гIодов ккун вуго. РачIун руго гуржиял тIаде, цIеххон буго – мун щив, кисса – ян абун. Щиб гьабуниги бицун гьечIо гьасс. Гьаб гъалмагъалалде тIаде цоги гIиял къаяздасса гIадамалги рачIун руго. Ссверун лIугьун балагьанила гьал, пайда щиб – лIукъ-лIукъун хвеялде ван вугониги, къорицца ккураб бацI гIадин ццидаххарав ярагьунев гьитIинав гIолохъанчи вугила. Цояз абунила бацIицца бацIил гIамал теларин, рачIайин гьав чIван реххизин абун, цояз абунила гIайиб гурищ гьитIинав гIолохъанчи, гьаб сапар гьадин ккун тун нахъа тIокIав вачIинарин гьав, рачIа гурхIел гьабизин абун. Аххир цоясс абунила гьав чи диццаго хьихьизе тIадеги восила, рокъовеги вачина абун. Гьассде гIемер данде чIчIолев чиго вахъинчIого гуржиясс ХIожол ХIожо гьакидаги лъун жиндирго рокъове щвезавунила. Гуржиясс лълъикIал даручагIи ахIун, ХIожол ХIожое дараби гьаризе тIамунила, лълъикIаб квен кьун, хьихьанила, цIакъ гьассул ургъел гьабунила. Цо моцIцIгIанаб мехх бараб меххалълъ ццеве вукIарав гIадав чи лIугьанила гьассул. ЛIугьараб щинаб жоялълъул пикру-хIисаб гьабураб меххалълъ ХIожол ХIожода гьадинаб жо ракIалде кканила: – ГьадигIан дие хъулухъги гьабун, захIматги бихьун дун щайдай гьав чияссе? Мун щив абун тIоццебе цIеххараб меххалълъ диццаги бицинчIо, тIокIаб гьассги цIеххечIо, рачIа дицца гьалълъул цо кIалъай гьабизин гьассдеххун, кин бугониги дир рухI хвассар гьабурав чи вуго гьав, гьаб жо дида кIочон тезе бегьиларо. Цо къоялълъ ХIожол ХIожоцца гуржияссе жиндир ракI чучанила: – Дун вуго Унссоколосса ХIожол ХIожо, дуцца дун холев бакIалдасса вахъинавуна, дуе гьабизе лълъикIлъи лъаларого вуго дун, дуцца дун цIакъ нечезавуна, ххассго гьаб лIукъел ккеялълъе сабабги дун рокъове вачун хьихьизе гIадаб букIинчIелълъул. ХIисаб щиб дуцца дие гьаб лълъикIлъи гьабиялълъе, гьалълъул цо магIна батила? Гуржияв, гьасс гьаб ххабар бицараб меххалълъ, цо тамашаго вохханила. Тирщун тIадеги вахъун, бан къвалгун къочанила ХIожол ХIожода, роххалил магIу бачIанила чваххун; гьанже бицанила гуржиясс гьаб ххабар: – Дур инссуцца дун, гьитIинав чи, гьанже мун гIадин вачIинеги вачIун гьанивегун гьанисса хъамун ун вукIана Унссоколове. Гьенив гьесс дун жиндирго васлъун хьихьана цо чанго соналълъ, цинги, гIолохъанчиги гIезавун рокъове виччантана дир гьариялда рекъон. Дун дова вугеб меххалълъ дир ракI гьанибе, гуржиялълъе цIцIалаан, гьаниве щун тун ххадуб дир ракI кидаго Унссоколиб букIунаан. ЛIукъун магIарда мун ватараб меххалълъ танкан абун Анссадерил росу, гIолохъаби, живго ХIожо, гьессул хъизан ццебе бачIун чIчIана дида, дирго вацц вихьаравгIанги воххун вукIана дун мун вихьараб меххалълъ. Бихьулищ дуда, вукIинеги дир вацц вукIун вуго мун. НилIер гьаб гьоркьоблъи, кватIун бугониги, тIатун лълъикI ккана. ХIожол ХIожоцца гьелдасса нахъеги бана гьаниб цо моцIцIганассеб мехх. Ине бокьараб меххалълъ гуржиясс гьассие лълъикIаб чу-ярагъгун ретIел-тIеххги къачIанила; ххуржинир эбелалълъе сайигъаталги лъун, цIакъ лълъикIаб хIалалда нухда тIамунила. ХIожол ХIожо рокъове щун цо-кIиго лъагIел бараб меххалълъ эбелалде ракIалде кканила гьассие чIчIужу ячине. Гьеб пикру васассда бицараб меххалълъ гьавги разилъун къачIадизе лIугьанила. РосолIа жидеда рекъарай гIаданги ятун, гьассие гьейги гьелълъие гьавги вокьун, къотIи-къайги тIубан, бертаде къачIаданила. ХIожол ХIожоцца хъван кагъат битIун буго Гуржиялде жиндирго гьобол берталълъе ахIун. Бертаде кIиго къо ххутIараб меххалълъ кIиго-лъабго гьалмагъзабигун цадахъ, гIемераб сайигъатгун щванила гуржияв. Росолълъе лIугьун вачIунев меххалълъ лълъадаре унел ясазул къокъа данде кканила гьассда. Гьезда гьоркьой йикIарай цо хъахIаб гормендуги къарай, чIчIегIераб кьенссер-бералълъул гIадамалълъул берцинлъиялълъухъ балагьун виххун ххутIанила гьав. ХIожол ХIожохъе щвараб сагIаталълъ гьасс жинда йихьарай гIадамалълъул бицанила. ХIожол ХIожоцца абунила гьассда: – Дидасса кIудиявги вуго мун, амма дуцца жеги чIчIужу ячун гьечIо. Дир хIисабалда тIоццебе дур бертин тIубазабизе ккола нилIецца. РачIа нилIецца гьадай дуда йихьарай гIадан дуе ячинин, цинги дир бертадул тIалабги гьабила нилIецца. Гуржиясс абунила: – Дуцца бицунеб битIараб буго, амма нижехъ чIчIужу гьедигIан ххехх ячунаро. Лъеберго, лъебералда щуго сон бараб меххалълъ рачуна нижехъ лълъудби. Гьанже дун ригьалде щунги вуго, дун дур гIакълуялда рекъола. КIиябго бертин тIубазабила нилIецца. Гьанже ХIожол ХIожоцца жиндирго бертин гъоболассе ссверизабунила. Гуржияссе йокьарай ясги жиндирго абурай гIадан ятун, гьасс инеги ун гьелълъул эбел-инссуда ва гьелда жиндаго ккараб жо ва жинцца ваццассул бакIалда вугев гьоболассул адаб-хIурмат цIунун гьабураб хIукмуялълъул бицанила. Яс ссихI къотIун чIчIанила. Эбел-инссуцца абунила: – Ясалълъул иххтияр нижецца духъе кьуни бугин, дуего бокьараб гьабе, – ян. Нахъеяб къоялълъ гуржияссул гъалмагъзабазда цо Унссоколосса чиясс бицун лъан буго гуржияссе ячинехъиней йигей гIадан ХIожол абурай яс йикIин. Гьез бицун, гуржиясс цIакъ гIажаиблъи гьабун, жиндир ккараб гъалатIалълъулги ХIожоцца жиндие гьабизехъинеб букIараб намусалълъулги пикру гьабун тамашалъун ххутIанила. Вилълъун ХIожода кIудияб гIайибги гьабун, хъващтIан бертин ХIожоде буссинабиялълъул тIалаб гьабунила гьасс. Анкь Унссоколобги бан, ссухIмат-кепги тIубазабун, гьудул-гьалмагъзабазе сайигъаталълъе анссадерил тIилал, хъалиябиги росун нахъ вуссанила гьав. Рокъове щун дагьаб мехх балелде гьасс чIчIужуги ячанила, ххеххгого гьазие васги гьавунила. Жиндир заман щвараб меххалълъ гьев васги цIцIализе витIун паракъат вукIанила гьав. ЛълъикIалан сонал анила, цо заманаялълъ ХIожоде ракIги щун, гьасс хъванила кагъат, дагьаб мехх базе, хъизанги бачун, мун нижехъе вачIа абун. Живго ине ссанагIат бугеб заман букIинчIила гьассул. ХIожо хъизанги бачун вачIанила гьассухъе. ХIожол гьеб меххалълъ кIиго лъагIарав гIадав вас вукIанила, гьевги кIудияй эбелалълъухь тун ун руго гьал гуржиялълъе. Анкь бараб гIадинаб меххалълъ гуржияв цадахъ чIчIужуги ячун цо къваригIилалълъе ине ккун, ХIожода абунила гьасс, дун цо лъабго къоялдассан вуссинин, дуцца гьаб рукъ-къаялълъулги тIалаб гьабе, квешав чи ва цIцIогьорассдасса цIцIодорлъиги гьабеян абун. Доб заман букIун буго цIакъ квешаб заман. Щивасс жинди-жиндир бакI, хъала цIунулеб гIадин, цIунизе кколеб букIун буго. Багьадурлъи-бахIарчилъийин абун талавурчилъи-цIцIогьги цIакъ тIибитIун букIун буго. Цояз бикъулеб-хъамулеб, цояз чIвалел, цоял цIцIогьабазда ххадур, гьедин бада-гъудуралълъул заман букIун буго. Кодоб ярагъ гьечIого чи сапаралдеяли щай гурин, магъилълъе, хIатта рокъосса къватIивецин лIугьунареб заман букIун буго. Гуржияв ун нахъияб сордоялълъ цIцIализе ун вукIарав гьассул вас моцIцI базе рукъове виччарав чи Тулписалдеги щун, каву буххун буго. ХIожода гьаб рагIун гьечIо. ГIемераб меххалълъ буххун рагIичIеб меххалълъ гьав вас живго ругьунаб бакIалдасса тIадеги вахун, кавуда тIассан дваман рагьде кIанцIун вачIун вуго. Гьеб меххалълъ ворчIарав чи, ХIожо босун туманкIгун кIанцIарав къватIиве, гьабураб гьаракь: гьав диде ахIдолев чияр чиго щиван абун ракIалде ккарав вас ссихI къотIун чIчIун вуго. Гьедин гъов чIчIараб меххалълъ ХIожоцца, гьав чи лълъикIав чи гурилан абураб жоги ракIалде ккун, речIчIун туманкIгун чIван реххун вуго гуржияссул вас. Жинцца чIварав чи щивалицин лъачIого, ХIожоцца вехъерхъун гьав гъоркьарокъове реххун тун вуго. Ургъел ккун гIадинги вукIанила гьав цин, бугониги, нахъа ракIги гIодобе биччан, гьедегIан пикруго гъабичIого гIадин ххутIанила гьаб иш гуржияв вуссинегIан. Цо заманаялълъ рачIанила гуржиявги чIчIужуги. – Гьа, кканищ щибниги жо дун гьечIого? – ян гьикъанила гьасс. – Валлагь, къассде цIцIогьоде вачIун вукIарав цо чи вугинхха гьагъава дицца чIван, лъаларо щивали, мунго балагьехха, – ян абунила ХIожоцца. Вилълъун балагьанила гуржияв, вугила жиндирго цохIо вукIарав вас чIван лъун бухIун чехьги бахъун, хIанчIун жиндирго кIветIгун, вилълъанила гьав жиндирго чIчIужуялълъухъе. Бицанила гьалда лIугьараб жо. ГIодизе-чIвадизе лIугьуней йикIанила гьай, россасс абунила: – Гьанже гьелълъул пайда гьечIин, гьаб иш нилIецца къватIибе бахъичIого бахчизе ккола, ххассго гьоболассда лъазе биччазе бегьиларо. НилIецца вас ахикь вукъила кколеб хIалалда, – ян абун. Гьаз васги вукъанила щибниги ХIожода ва гьессул чIчIужуялда хIал лъазе биччачIого. Цодагьал къоял ран ххадуб гьалги Унссоколоре руссанила. Гьал ун ххадуб, кколеб ххадуб жоги гьабунила гуржиясс васассе. ХIожо рокъове щун моцIцI балелде ххадуб гуржияссул кагъат бачIанила: – Дуда чIварав чи, – ян хъвалеб букIанила гьасс, – дир вас вукIана. Дир чехь бухIараб гIечIого, дургийищ гьанже бухIизабилебан дицца дуда лъазабичIого тана. КигIан кин бугониги, бидухъ би абураб нужерго кициялда рекъон, дир васассул би гIодоб тезе бокьун гьечIо дие. Дуцца дихъе дурго вас витIе чIвазе, нилIер гьудуллъи тIечIого гIаданлъиялда билълъинабизе ракIалда батани. Цин ХIожол жинцца чIварассда ракI гурхIанила, цинги жиндир вас чIвазе витIиялълъул ургъел кканила гьассда. Бералда бихьулаго чIвазе вас кин витIилев? ВитIичIого тани магIарул яхI-намус, гьелдасса цIакъаб бидухъ би бецIизе кколеб гIадат. Цояб рахъалдассан чIчIужу йигила юхарилей-чIвадилей. ГIемер ургъараб меххалълъ гьазул хIукму кканила вас витIизе. МагIирукъ лъун букIанила гьассул рокъоб вас инегIанго. Къо-мехх лълъикIги гьабун, витIун анила вас. Цо анцIго къоялдассан витIарав чиги вуссанила бидул цIураб васассул ретIелги босун. Цо дагьаб заман ун ххадуб ХIожол ХIожое цоги вас гьавунила. Гьалълъул ххабар гьасс Гуржиялълъе гьоболассухъеги битIанила. Гьасс хъванила гуржияссде: – Дидасса ххатIа ккун дур васги хванин, дуцца гьессул рецIелги бахъанин. Гьанже нилI цоцазда тIассаги лIугьун, ракIазулI хъублъиялълъул рагIадгIаги ккун батани, гьебги нахъе бацIцIад гьабун цIияб гьудуллъи гьабизин. Дуцца чIварав васассул бакIалда дие васги гьавунин абун. Гуржиясс жиндихъе кагъат босун вачIарав чияссухъе кьун гьассие гьадинаб жаваб бачIанила. – Гъоб дуцца бицунеб хъублъиялълъул рагIадали щай гурии, дир рекIелI гьелълъул махIцин гьечIо. Амма нужерго гIадат билълъинабизе ккола тIубараб куцалда, – ян хъвалеб букIанила гьасс, – дуцца чIварав дир вас вукIана цIцIалун лIугIизе гIагарарав гIолохъанчи; дуцца дихъе чIвазе битIун бачIана лъимер. Кин кколеб дуда, нилI рарщалъун ругищ? Дир хIисабалда гьечIо. Рарщалъизе ккани, дуцца дихъе чIвазе гьев цояв васги витIизе ккола. Гьеб меххалълъ тIуба-гъубала нилIер гьоркьоблъи. Гьанже цIакъго ургъел кканила ХIожодаги чIчIужуялдаги. ХIожоцца гIемер пикру гьабунила гуржиясс бачIараб кагътил. ХIисаб гьабураб меххалълъ гуржияссул пикру битIун бихьанила гьассда. Гуржияссул бакIалда дунго вукIаравани, диццаги гьедин гьабилаанин абураб жоялда ракI чIчIанила гьассул. ГIодулей-чIвадулей эбелги тун анила вас витIун. ИчIго-анцIго къо иналде бидулI белъараб ретIелги бачIанила. КIиявго васассдассаги махIрумлъун, кIудияб ургъалида инел рукIанила ХIожолги чIчIужуялълъулги сонал. ГIажаиблъун гIадамалги рукIанила гьазда, бералда бихьулаго чIвазе лъималги ритIун, гьаз гьабураб жоялълъухъан абун. ГIадамаз толел рукIинчIила гьал цо хIалалда гьеб-доб бицунаго. Гьаб къагIидаялда анила 14-15 сон. Ххабар гьечIого цо нухалълъ гуржияссул кагъат бачIанила. Лъималазул хобалдеги рахине, гьел ракIалде щвейги гьабизе, дагьаб мехх жидехъги базе рачIаян ахIулел рукIанила гьасс гьал. Ургъанила росс-лълъади ун лълъикIдай, лълъикI гуродай абун. КIиязулго ракI иналда тIад рекъолеб букIанила, амма гIадамаз васвасал ккезарулел рукIун руго. – Валлагь, гьанже гьев тушманассде тIадеги ани, анкьабго рекъезабила нужецца, – ян абулеб букIанила гьаз. ГIадамазухъги гIинтIамичIого, кьабун рахъун анила гьал. Лъималазул хобалгIаги гурищ нилIеда рихьилелан абураб пикруялълъ рекIее парахалъи бачIунеб букIанила гьазул. Щванила гьал гуржиялълъе. Ххош-баш гьабунила гьалбадерицца, цинги гьазул ракI гьалакго букIинги лъан, гьаз ХIожоги чIчIужуги ахикье рачанила. Рихьизарунила гьаз хобал. Бугила цо кIудияб хоб; гьелда асскIоб кIиго гьитIинаб хобги бугила. ТIад тIугьдул чIчIун берцинго къачIанги ругила гьал. ХIожоги гьессул лълъадиги ракIалги пашманлъун, дагьал гIодизеги гIодун, гьалбадерицца рокъоре рачанила. Балагьанила, бугила кIудияб тIутI къачIан, тIутIалда тIад квана-гьекъолеб жоялълъул камураб жо гьечIила. Ссверун гIодор чIчIун гIемерал цIакъ аваданал кепал гьалбал ругила. Гьал гIодор чIчIезе бакIги бугила хIадур гьабун тун. ГIодор чIчIезарун гьалбалгун киназго лълъарал цIунила. Рукъалълъул бетIерасс борххун жиндирго лълъаргун, жиндир гьитIинаб меххалдасса нахъе Унссоколосса ХIожолгун ккараб щинаб жо бицанила, цинги абунила гьасс: – Дир вас ХIожол ХIожоцца ххатIаялдалъун чIвана. ХхатIаялдалъун гуро ургъунго чIван вукIараваниги дицца гьессул кIиявго васали щай гурин, цонигияссда килищ хъвазецин ракIалде ккелароан. Бидул тушманлъиялда тIад рекъоларо дун. ЛекIаз бидул тушманлъиялълъул гIадат кутакалда хIалтIизабула. Гьедин гуребани, ХIожол ХIожоцца дихъе чIвазе васал ритIилаанищ? Кидаго ритIилароан. Дицца гьел чIван рукIараланийищ лълъикI букIинебан, ялъуни дицца гьабураб куцищ лълъикI? Ургьун рихье нуж, – анги абун, гьасс абунила жиндирго чIчIужуялда, – рачея гъол гьанире – ян. Инеги ун, чIчIужу доб рокъосса цIубараб моцIцI гIадав кIиго васги цадахъ гьавун ячIанила. НуцIцIил кIалтIа рахъун чIчIун гьалги тун, гьай жиндирго бакIалда гIодой чIчIанила. – Гьале нужер кIиявго вас, – ай абунила гуржиясс ХIожодаги чIчIужуялдаги, – нужер гIадат билълъинабун букIарабани, жакъа нужеда гьал рихьизе рукIинчIо. Гьеб меххалълъ цинги ХIожоги чIчIужуги роххуцца гIодулаго ххурхханила кIиявго васассда. ЛълъикIалан меххалълъ жалго гьалги тун ссихI къотIун чIчIанила гьанир рукIарал гьалбал. Гьазухъ балагьун ракI къварилъанила гьазул. Цинги гьалги гIодорчIчIун паракъалъараб меххалълъ гуржиясс ххадуб кинаццаго гьураги ахIун гьазул савлухъ гьекъанила. КIиабилеб лълъар борххараб меххалълъ гуржиясс абунила: – Дицца гьаб лълъар гьекъола ХIожол ХIожолълъги гьессда релълъарал цогидал лекIазулълъги бугеб яхIгун намус, гъорлI бидул тушманлъи гьечIого, наслуялълъ наслуялълъухъе кьолаго, азарго соназ чIахъулаго айги абураб жоялълъе гIолон. Гьассул гьаб каламалда киналго разилъун гьураги ахIун гьекъанила. Ххадуссеб лълъар ХIожол ХIожоцца борхханила: гьасс абунила: – АнцIила щугониги соналълъ диццаги дир чIчIужуялълъги бидул тушманлъиялълъул кьогIлъи чIамуна. АнцIила щуябго соналълъ гьав чиясс нижер кIиявго вас чIваравилан абураб жоялълъ бухIулеб букIана нижер ургьимесс. Бидул тушманлъи бидул ваццлъиялде буссинабизе рекIел хIал гIурав бахIарчияссул савлухъ гьекъола дицца, – абун. Гьазул гьаб квана-гьекъей бертаде буссанила. Лъабго сордо-къоялълъ гьабунила гьаз бертин-ссухIмат. Ункъабилеб къоялълъ жалго ххутIараб меххалълъ абунила гуржиясс: – Ле, гьудул, ХIожо! КIиго васгун мун, цониги гьечIого дун, бегьилищ гьедин. – Бегьиларо. – Кинха гьабилеб? – Дуццаго бокьараб хIукму гьабе, гьаб ишалда жаниб дир щибниги рагIи бицине бакI гьечIо, дун дуе мукIурав вуго. – Дие бокьарабги гьабиларо, рачIа васазе бокьараб гьабизин. – РачIахха. АхIанила васал. Гьикъанила гьазда гуржиясс: – Нижги руго нужер эбел-эмен, гьалги руго. Бокьарав гьазда цадахъ а, бокьарав нижеда цадахъ чIчIа. Гьас гьадин абураб меххалълъ кIудиявав гуржияссдеххун балагьун гьиманила, гьитIинавав эбелалдеххун къанила. ЧIаго ратаралдасса нахъе кIиявго гьанив таниги ургъел щибанги абун, ХIожоги чIчIужуги гьитIинав васги вачун магIарухъе руссанила. ГIорхъоде щвезегIан гьал тIоритIизе гуржиявги кIудияв васги рачанила.

  • Гьабигьанассул лъимал | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ГЬАБИГЬАНАССУЛ ЛЪИМАЛ ВукӀанила, вукӀинчӀила, цо херав гьабигьан вукӏанила. Гьессул лъабго васги вукӀанила. Цо заманалдассан гьабигьан хванила. Эмен вукъун ххадуб, гьессул нахъе ххутӀараб ирс сабаблъун, лъималазда гьоркьоб дагӀба кканила. ХӀурул цӀезабун мегежгун, жиндие гьобо хӀажат гьечӀиланги абун, кӀудияв ваццасс жиндиего гьабихъе лълъим бачунеб рахъ тӀасса бищанила. - Валлагь, дидаги ракӀалдасса унаро кидаго хӀурул цӀураб ретӀел-хьитгун, михъ-мегежгун вукӀунев вукӏарав эмен. Диеги гьабидассаги гьелълъул тӀохго бокьила, - ян абунила гьоркьохъев ваццассги. - ЦӀуни, дир цӀун рукӀа абе михъалги ретӀелги хӀурул, - анги абун, бищун гьитӀинав ваццасс инссул ххутӀараб гьобо хӀалтӀизабизе байбихьанила. КӀудияв вацц вукӀунаанила лълъадал рахъда асскӏов гӀурччинххарда вегун, гьоркьохъев вукӀунаанила гьабил тӀохда бакъалда вегун, бищун гьитӀинавин абуни, хӀурул цӀезабун ретӀелгун, рачӀа-рачӀаразул тӀорщел ххунев вукӀунаанила. Гьабихъе вачӀарав щинасс гьессие магъалоги кьолаанила. Цо заманалдассан кӀудияв ваццассда бичӏчӀанила жинцца гӀантаб жо гьабураблъи, гьабил рахъ жиндиего боси, гьелдасса нечон, росу тун ине къватӀиве вахъанила. Унев, унев вукӀун, гьев цо бецӀцӏаб кӀкӀалахъе кканила. Гьеб кӏкӏалал гъварилъуда иццда асскӀоб бегун бугила цо кӀудияб Аздагьо. - Салам гӀалайкум, гьава рекъараб, лълъим цӀцӏорораб батаги, - ян абунила Аздагьоялдасса цӀакъго хӀинкъарав гьабигьанассул васасс. - Дур гьел лълъикӀал рагӀабазе гӀоло гуревани, гьабсагӀат кІкІвинаан дицца мун, - ан абунила Аздагьоялълъ. - Гьелълъухъги баркала дуе, - ян абунила гьесс. - ГӀенеккея, гӀолохъанчи, дуда кечӀ ахӀизе яги маргьа бицине лъаларищ? - ан гьикъанила Аздагьоялълъ. - Лъаларо, - ян абунила гьесс. АхӀизе кечІги лъаларев, бицине маргьаги лъаларев чияссе дицца гьадин гьабулиланги абун, хапун восун къулчӏчӏун виччан танила Аздагьоялълъ гьев. Гьабигьанассул гьоркьохъев васассдаги чӀалгӀанила гьабил тӀохда вегун. Жинццаго гьабураб гӀантаб жоги лъан, гьевги вахъанила росулӏа къватӀиве. КӀудияв ваццго гӀадин, гьевги кканила добго Аздагьоялълъул чохьониве. Жиндасса кӀудияв кӀиявго ваццассул араб бакӀ лъачӀого ххабар тӀагӀиндал, гьитӀинав вацц къватӀиве вахъанила гьел ралагьизе. Унев, унев вукӀун, гьевги кканила дов кӀиявго кӀудияв вацц ккараб кӀкӀалахъе. Гьениб батараб иццда тӀассан кӀанцӀулев вукӀарав чи гьев Аздагьодул мугъзада тӀаде кканила. - Салам гӀалайкум, лълъим цӀцӏорораб, гьава рекъараб батаги, Аздагьо, — ян абунила гьесс, щибго виххичӀого. - Дур гьел лълъикӀал рагӀабазе гӀоло гуревани, гьабсагӀат кІкІвинаан дицца мун. АхӀизе кечӀниги бицине маргьаниги лъаларебищ дуда, гӀолохъанчи? - ян абунила Аздагьоялълъ. - Валлагь, лъалебхха. Бокьани кечӏ ахӀила, бокьани маргьа бицина, дуе бокьараб тӀасса бище, - ян абунила васасс. - Маргьаянги абун, унго-унго лӏугьараб жо бицинехъин ватилахха мун. - РачӀа гьадинаб къотӀи гьабизин: дицца унго-унго лӏугьараб жо бицунеб бугони, дуцца дун кӀкІвине бегьула, диццани маргьа бицунеб меххалълъ, мун гьоркьоб кӀалъани, дицца дур гьаб мугъзадасса квер чІван чӀоло бахъила, рачел гьабизе. - ЛълъикӀ буго. Рице дурго гьерссал, кигӀан кӀудиял рокьаниги, къотӀиялда дун разияб буго. Цин ццебеккун дицца дуе бицинин, Аздагьо, дун гьаниве дуда асскӀове ккараб куцан, абунила васасс. - Дун гьаниве ккана дирго гӀулби сабаблъун. Цо соналда дун вукӀана гьел хьихьун. Гьеб сон букӀана кутакалда ракъдалаб, гьезие квине ххерги, гьекъезе лълъимги букӀинчӀо. Дицца гӀулби гӀурухъе рачана лълъим гьекъезе. Балагьана гури кисса-кибего - тӀад цӀцӏерги чІван, гӀулбузе лълъим гьекъезе бакӀ гьечӀо. Босун гӀащтӀигун, гъурун цӀцӏергун, лълъадалӏе цо каратІ гьабуна. Балагьана - лълъим цӀакъго гӀодобегӀан буго, гӀулбузул кӀал гӀунтӀулеб гьечӀо лълъеде. Гьебмеххалда дицца дирго бетӀер черххалдасса батӀа гьабуна, жаниб букӀараб гӀадалнахги нахъе реххун, лълъадал цӀезабун гьебгун, гӀулби гьекъезаруна. Гьаниб аххадегӀан, гьадигӀан цӀцӏорон бугеб гьаб лълъим тӀарада, баккун бачӀунеб бакӀалда, киндай бугоян ракӀалде ккана дида. Ун гӀурул бетӀералдегун, цо заз-хъарахъги бакӀарун, гӀурул бетӀералда цӀа гъуна. Дицца бакараб цӀаялдассан гӀуруда цӀа рекӀана, гьелълъул рагӀаллъабиги чӀурхӀа-кӀутӀун реххана. Гьеб цӀаялдасса хӀинкъарал дир гӀулби тӀура-риххун ана. Гьебмеххалда дицца гӀащтӀи кодобе босана, балагьана гури - гӀоркь ххутӀун буго, гӀащтӀийин абуни, бухӀун, биун тӀагӀун буго. Цо заманалда дида ракӀалде щвана дирго бетӀер, гьеб босизе гъол гӀулби гьекъезарураб бакӀалде вилълъана. Гьениб дир ботӏрол гвангвара буго, жаниб наяз цӀун. Гьанже гӀулбиги рилун, гӀадада вукӀине бегьуларилан диццаго дидагоги абун, наязул цӀураб дирго гвангвара дицца дирго кӀигъуждузда лъуна. ЛълъикӀаб кӀиго ритӀучІги ккуна. Хъун гьелгун, гьан диццаги квана, тӀомал гъотӀода рана, гъветӀги гӀощтӀол гӀоркьалълъ къотӀун, диего гьоко гьабуна. Дир гвангвараялда жанир ругел наязда гьоркьосса кӀиго най буго цоцалълъ къаццандулеб, ахӀи-хӀуралда. Гьезул щибалълъ абулеб буго дудасса дицца гӀемер гьабулин гьоцӀцӏоян. Дицца гьезда абуна гьеб къецц рагъичӀого тӀубазе кӀолин, нужерго гьоцӀцӏо гьабизе лӏугьайин, балагьилин кинал бергьунаяли. Гьебмеххалда кӀиябго найицца байбихьана гьоцӀцӏо гьабизе. РитӀучӀазул тӀомалги цӀун, тӀассангицин чваххизе лӏугьана. Гьел гьацӀцӏул цӀурал тӀомалги гьакида лъун, гьакида гьеб кӀиябго найги бан, дицца ххазабуна. Цо заманалда цояб най чӀчӏана, гьокоги кьурдасса гъоркье ине дагьаб ххутӀана. Гьабго щай чӀчӏарабилан найида кьабизе цІцӏал борххулев вукӀана, ракьуда гьебги тункун, цІцӏалагӀоркьалълъ дун хъахІнакІкӀалӏе реххун ана. Гьениб цо хапуралълъухъе накӏкӀул кесек кквезе щвана дихъе. Гьебги ккун, ракьалде далдалун ххутӀана дун. Дицца ккураб накІкІ буго боржун унеб, гъоркье балагьана, гьениб лълъим бихьула. Биччан тун накІкІгун, кӀанцӀун виччан тана лълъелӏе ккезеян, битӀахъе дур мугъзада тӀаде ккана. - Гьебни гьересси буго дур, - ан абунила Аздагьоялълъ. - Гьа, гьоркьоб кӀалъани, квер чІван дур мугъзадасса чӀоло бахъизе къотӀи букӀана. Бихьея ххеххго мугъ гьанибе. Аздагьоялда бичӀчӀанила дагӀбадун жо кколареблъи. Гьелълъ гьев васассда ццебе мугъ ккунила. Босун рекӀараб нусгун, Аздагьоялълъул горбодасса бахъараб рачӀчӏалде щвезегӀан тӀон ччукӀанила гьабигьанассул васасс. Гьелълъул ургьив, хвечӀого, чӀаго жиндирго кӀиявго ваццги ватун, гьелги ххвассар гьарунила гьесс, чІван Аздагьоги рехханила. Рачун ваццалгун, рокъове вилълъанила. Гьелдасса нахъе лъабавго вацц цоцалълъ рекъон, цадахъ гӀумру гьабизе лӏугьанила. habihanaSul ;imal wujanila, wujinzila, co [eraw habihan wujanila. heSul ;abgo wasgi wujanila. co RamanaldaSan habihan [wanila. emen wuqun {adub, heSul na]e {uTarab irs sabab;un, ;imalaRda horpob dafba Kanila. \urul veRabun megeDgun, Dindiye hobo \aDat hezilangi abun, judiyaw waCaS Dindiyego habi]e 'im baxuneb ra] TaSa bi?anila. - walah, didagi rajaldaSa unaro kidago \urul vurab reTel-Fitgun, mi]-megeDgun wujunew wujaraw emen. diyegi habidaSagi he'ul To[go bopila, - yan abunila horpo]ew waCaSgi. - vuni, dir vun ruja abe mi]algi reTelgi \urul, - angi abun, bi?un hiTinaw waCaS inSul {uTarab hobo \alTiRabiRe baybiFanila. judiyaw waC wujunaanila 'adal ra]da aSjow furXin{arda wegun, horpo]ew wujunaanila habil To[da baqalda wegun, bi?un hiTinawin abuni, \urul veRabun reTelgun, raza-razaraRul Tor?el {unew wujunaanila. habi]e wazaraw ?inaS heSiye maGalogi polaanila. co RamanaldaSan judiyaw waCaSda biZanila DinCa fantab Do haburab;i, habil ra] Dindiyego bosi, heldaSa nexon, rosu tun ine qwaTiwe wa]anila. unew, unew wujun, hew co beVab Jala]e Kkanila. heb Jalal Gwari;uda iCda aSjob begun bugila co judiyab aRdaho. - salam falaykum, hawa reqarab, 'im Vororab batagi, - yan abunila aRdahoyaldaSa vaqgo \inqaraw habihanaSul wasaS. - dur hel 'ijal rafabaRe folo gurewani, habsafat Jwinaan diCa mun, - an abunila aRdahoya'. - he'u]gi barkala duye, - yan abunila heS. - feneKeya, folo]anxi, duda kez a\iRe yagi marha bicine ;alari?& - an hiqanila aRdahoya'. - ;alaro, - yan abunila heS. a\iRe kezgi ;alarew, bicine marhagi ;alarew xiyaSe diCa hadin habulilangi abun, [a<un wosun qulZun wiXan tanila aRdahoya' hew. habihanaSul horpo]ew wasaSdagi zalfanila habil To[da wegun. DinCago haburab fantab Dogi ;an, hewgi wa]anila rosu`a qwaTiwe. judiyaw waCgo fadin, hewgi Kanila dobgo aRdahoya'ul xoFoniwe. DindaSa judiyaw jiyawgo waCaSul arab baj ;azogo {abar Tafindal, hiTinaw waC qwaTiwe wa]anila hel ralahiRe. unew, unew wujun, hewgi Kanila dow jiyawgo judiyaw waC Karab Jala]e. henib batarab iCda TaSan janvulew wujaraw xi hew aRdahodul muGRada Tade Kanila. - salam falaykum, 'im Vororab, hawa reqarab batagi, aRdaho, — yan abunila heS, ?ibgo wi{izogo. - dur hel 'ijal rafabaRe folo gurewani, habsafat Jwinaan diCa mun. a\iRe keznigi bicine marhanigi ;alarebi? duda, folo]anxi& - yan abunila aRdahoya'. - walah, ;aleb{a. bopani kez a\ila, bopani marha bicina, duye boparab TaSa bi?e, - yan abunila wasaS. - marhayangi abun, ungo-ungo `uharab Do bicine]in watila{a mun. - raza hadinab qoTi habiRin, diCa ungo-ungo `uharab Do bicuneb bugoni, duCa dun Jwine behula, diCani marha bicuneb me{a', mun horpob ja;ani, diCa dur hab muGRadaSa kwer zwan zolo ba]ila, raxel habiRe. - 'ij bugo. rice durgo herSal, kifan judiyal ropanigi, qoTiyalda dun raRiyab bugo. cin CebeKun diCa duye bicinin, aRdaho, dun haniwe duda aSjowe Karab kucan, abunila wasaS. - dun haniwe Kana dirgo fulbi sabab;un. co sonalda dun wujana hel FiFun. heb son bujana kutakalda raqdalab, heRiye kwine {ergi, heqeRe 'imgi bujinzo. diCa fulbi furu]e raxana 'im heqeRe. balahana guri kiSa-kibego - Tad Vergi zwan, fulbuRe 'im heqeRe baj hezo. bosun fa?Tigun, Gurun Vergun, 'ada`e co karaT habuna. balahana - 'im vaqgo fodobefan bugo, fulbuRul jal funTuleb hezo 'ede. hebme{alda diCa dirgo beTer xer{aldaSa baTa habuna, Danib bujarab fadalna[gi na]e re{un, 'adal veRabun hebgun, fulbi heqeRaruna. hanib a{adefan, hadifan Voron bugeb hab 'im Tarada, baKun bazuneb bajalda, kinday bugoyan rajalde Kana dida. un furul beTeraldegun, co RaR-]ara]gi bajarun, furul beTeralda va Guna. diCa bakarab vayaldaSan furuda va rejana, he'ul rafal;abigi zur\a-juTun re{ana. heb vayaldaSa \inqaral dir fulbi Tura-ri{un ana. hebme{alda diCa fa?Ti kodobe bosana, balahana guri - forp {uTun bugo, fa?Tiyin abuni, bu\un, biun Tafun bugo. co Ramanalda dida rajalde ?wana dirgo beTer, heb bosiRe Gol fulbi heqeRarurab bajalde wi'ana. henib dir boTrol gwangwara bugo, Danib nayaR vun. hanDe fulbigi rilun, fadada wujine behularilan diCago didagogi abun, nayaRul vurab dirgo gwangwara diCa dirgo jiGuDduRda ;una. 'ijab jigo riTuzgi Kuna. ]un helgun, han diCagi kwana, Tomal GoToda rana, GweTgi fo?Tol forpa' qoTun, diyego hoko habuna. dir gwangwarayalda Danir rugel nayaRda horpoSa jigo nay bugo coca' qaCanduleb, a\i-\uralda. heRul ?iba' abuleb bugo dudaSa diCa femer habulin hoVoyan. diCa heRda abuna heb qeC raGizogo TubaRe jolin, nuDergo hoVo habiRe `uhayin, balahilin kinal berhunayali. hebme{alda jiyabgo nayiCa baybiFana hoVo habiRe. riTuzaRul Tomalgi vun, TaSangicin xwa{iRe `uhana. hel haVul vural Tomalgi hakida ;un, hakida heb jiyabgo naygi ban, diCa {aRabuna. co Ramanalda coyab nay Zana, hokogi purdaSa Gorpe ine dahab {uTana. habgo ?ay Zarabilan nayida pabiRe Val bor{ulew wujana, rapuda hebgi tunkun, Valaforpa' dun ]a\naJa`e re{un ana. henib co [a<ura'u]e naJul kesek KweRe ?wana di]e. hebgi Kun, rapalde daldalun {uTana dun. diCa Kurab naJ bugo borDun uneb, Gorpe balahana, henib 'im biFula. biXan tun naJgun, janvun wiXan tana 'e`e KeReyan, biTa]e dur muGRada Tade Kana. - hebni hereSi bugo dur, - an abunila aRdahoya'. - ha, horpob ja;ani, kwer zwan dur muGRadaSa zolo ba]iRe qoTi bujana. biFeya {e{go muG hanibe. aRdahoyalda biZanila dafbadun Do Kolareb;i. he' hew wasaSda Cebe muG Kunila. bosun rejarab nusgun, aRdahoya'ul gorbodaSa ba]arab raZalde ?weRefan Ton Xujanila habihanaSul wasaS. he'ul urhiw, [wezogo, zago Dindirgo jiyawgo waCgi watun, helgi {waSar harunila heS, zwan aRdahogi re{anila. raxun waCalgun, roqowe wi'anila. heldaSa na]e ;abawgo waC coca' reqon, cada] fumru habiRe `uhanila.

  • Мекъи ккана | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    МЕКЪИ ККАНА Жиндирго рукІниб букӀанила цо БацІ. Гьелълъ рукъ киданиги я бацӀцӀунароанила, я къачӀалароанила. Гьеб кидаго басраго, чорокго, биххун ине хӀадурго букӀунаанила. Цо къоялда БацӀил рукъалда асскӀоссан унеб букӀараб Пил лъачӀого тунканила гьеб рукъалда, рукъги дагьабго гьетӀараб гӀадин лӏугьанила. - Мун дида тӀассалӏугьа, дихъа гьеб иш лъачӀого ккана. ГьабсагӀат къачӀалеб дицца дур гьеб рукъ, - ан абунила Пилалълъ. Пилалълъул устарлъиялълъе маххщел букӀанила. Босун квартӀа-гъецІгун, магӀалгун цо сагӀаталда жаниб гъоркь букӀаралдассаги щулаго къачӀан кьунила Пилалълъ жиндихъа гьетӀун букӀараб БацӀил рукъ. «Агьа! Балагьараб меххалълъ, гьаб Пил дидасса хӀинкъулеб батизе ккола, гьалълъ цин дида гьарана жинда тӀассалӏугьайилан, цинги дир рукъги къачӀана гьалълъ. Дицца гьаб тӀамила дие цӀияб рукъ гьабизе. ХӀинкъулеб бугелдасса нахъе гьалълъул рес щиб дицца абураб жо гьабичӀого», - ян пикру гьабунила БацӀицца, цинги ахІданила Пилалде: - ЧІчӏая! Дуда ракӀалдейщ кколеб гьедин бигьа-бихъаго мун дидасса борчӀилилан. Цо рахъалде кӀичӀизабураб дир рукъалълъул тӀох битӀизабизе, доба-гьаниб кӀиго-лъабго магӀги кьабун, дур хӀалтӀи лӏугӀарабиланищ дуда ккараб! Гуро, лӏугӀуларо! Дуцца дие цӀияб мина бан кьезе ккола, гурони дицца дуда ракь квинабизе буго. Ххеххлъи гьабея, ссундухъ балагьун мун бугебали! - ян. БацӀил рагӀаби рагӀараб меххалълъ, Пилалълъ, щибго жавабги кьечӀого, хапун ккун бакьулӏаги, БацІ анила реххун гьениб гӀагардаго букӀараб цо махІцараб лълъим бугеб хӀоринибе. Цинги ун, БацӀил рукъалда тӀад жибгоги гӀодоб чӀчӏанила. - Гьале дуе цӀияб рукъ, - анги абун, Пил апила. - Гьалълъул магІна кинго дида бичӏчӀуларо. Цин доб, дидассаги хӀинкъун, жинда тӀассалӏугьайилан гьарделеб букӀана, цинги ххадубин абуни, бихьулищхха долълъ гьабун тараб жо. Валлагь, бичӀчӀуларо дида гьалълъул магӀна, - ян абунила БацӀицца. meqi Kana Dindirgo rujnib bujanila co bav. he' ruq kidanigi ya baVunaroanila, ya qazalaroanila. heb kidago basrago, xorokgo, bi{un ine \adurgo bujunaanila. co qoyalda bavil ruqalda aSjoSan uneb bujarab <il ;azogo tunkanila heb ruqalda, ruqgi dahabgo heTarab fadin `uhanila. - mun dida TaSa`uha, di]a heb i/ ;azogo Kana. habsafat qazaleb diCa dur heb ruq, - an abunila <ila'. <ila'ul ustar;iya'e ma{?el bujanila. bosun kwarTa-Gevgun, mafalgun co safatalda Danib Gorp bujaraldaSagi ?ulago qazan punila <ila' Dindi]a heTun bujarab bavil ruq. «aha! balaharab me{a', hab <il didaSa \inquleb batiRe Kola, ha' cin dida harana Dinda TaSa`uhayilan, cingi dir ruqgi qazana ha'. diCa hab Tamila diye viyab ruq habiRe. \inquleb bugeldaSa na]e ha'ul res ?ib diCa aburab Do habizogo», - yan <ikru habunila baviCa, cingi a\danila <ilalde - Zaya! duda rajaldeyi? Koleb hedin biha-bi]ago mun didaSa borzililan. co ra]alde jiziRaburab dir ruqa'ul To[ biTiRabiRe, doba-hanib jigo-;abgo mafgi pabun, dur \alTi `ufarabilani? duda Karab! guro, `ufularo! duCa diye viyab mina ban peRe Kola, guroni diCa duda rap kwinabiRe bugo. {e{;i habeya, Sundu] balahun mun bugebali! - yan. bavil rafabi rafarab me{a', <ila', ?ibgo Dawabgi pezogo, [a<un Kun bapu`agi, bav anila re{un henib fagardago bujarab co ma\carab 'im bugeb \orinibe. cingi un, bavil ruqalda Tad Dibgogi fodob Zanila. - hale duye viyab ruq, - angi abun, <il anila. - ha'ul mafna kingo dida biZularo. cin dob, didaSagi \inqun, Dinda TaSa`uhayilan hardeleb bujana, cingi {adubin abuni, biFuli?{a do' habun tarab Do. walah, biZularo dida ha'ul mafna, - yan abunila baviCa.

  • Царада моцӏцӏ бихьи | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЦАРАДА МОЦӏЦӏ БИХЬИ Чанахъанасс цо кьурул ракьанда гудур гъун букӏанила. Гудраде тӏаде жо бачине, кьурулӏ кӏудияб магӏги чӏван, гьанги бан букӏанила. Гудрада хӏетӏе чӏчӏечӏого, гьанаде тӏаде ине рес букӏинчӏила. Цер, жого гьечӏого, кьурда магӏги чӏван, гьан балареблъиги, гьелда ццебе гудур батилеблъиги лъан, балагьун чӏчӏун букӏанила. Цӏакъ гьанаде ххиялги лъун букӏанила. Букӏаниги, гьанадасса рухӏ ххира гьабунила. Жибго гьанги танила, билълъанила. Цер ссверссвелеб, хьвархьвалеб букӏанила. Бацӏ данде кканила. Огь, кӏал кквечӏеб, ссанагӏат бугеб меххалълъ батулареб, жакъа битӏун кӏал ккураб къоялълъ батараб гьанилан гаргаданила. Дицца ккун гьечӏо гури кӏалан, Бацӏил цӏакъ гъира бахъанила. Гьеб дида бихьизабеян, бачун Цергун билълъанила. Долеян, гьанги бихьизабун, Цер нахъегӏан чӏчӏанила. Бакъараб Бацӏ гъирадулӏ тӏаде анила. Гудраде хӏатӏал щун рахъинелде, Бацӏил гьакӏкӏараб кӏал гьанаде щванила. Нахъасса хӏатӏалги гудрацца ккун, гьеб, гьаракьги гьабун, чехьатӏе рехханила. Гьан, чӏвархъан босун, Царада ццебе речӏчӏанила. Бацӏ чӏабар ххачалеб букӏанила, Цер гьанада кӏутӏулеб букӏанила. Бацӏицца Царада, вахӏ, мун кӏал ккун бугилан гурищ букӏарабан, гьикъанила. Дида гьанже моцӏцӏ бихьанилан, Цараццаги абунила. carada moV biFi xana]anaS co purul rapanda gudur Gun bujanila. gudrade Tade Do baxine, puru` judiyab mafgi zwan, hangi ban bujanila. gudrada \eTe Zezogo, hanade Tade ine res bujinzila. cer, Dogo hezogo, purda mafgi zwan, han balareb;igi, helda Cebe gudur batileb;igi ;an, balahun Zun bujanila. vaq hanade {iyalgi ;un bujanila. bujanigi, hanadaSa ru\ {ira habunila. Dibgo hangi tanila, bi'anila. cer SwerSweleb, FwarFwaleb bujanila. bav dande Kanila. Oh, jal Kwezeb, Sanafat bugeb me{a' batulareb, Daqa biTun jal Kurab qoya' batarab hanilan gargadanila. diCa Kun hezo guri jalan, bavil vaq Gira ba]anila. heb dida biFiRabeyan, baxun cergun bi'anila. doleyan, hangi biFiRabun, cer na]efan Zanila. baqarab bav Giradu` Tade anila. gudrade \aTal ?un ra]inelde, bavil haJarab jal hanade ?wanila. na]aSa \aTalgi gudraCa Kun, heb, harapgi habun, xeFaTe re{anila. han, zwar]an bosun, carada Cebe reZanila. bav zabar {axaleb bujanila, cer hanada juTuleb bujanila. baviCa carada, wa\, mun jal Kun bugilan guri? bujaraban, hiqanila. dida hanDe moV biFanilan, caraCagi abunila.

  • Церги бакьучги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Церги бакьучги Церги Бакьучги рукӏанила кӏудиял гьалмагъзаби. Гьел цо сордоялълъ чанаре анила, цинги гьезухъе щванила цо моххмохх. Гьез хӏукму гьабунила гьеб бищун ракъараб заманалде нахъе тезе. Гьедин гьебги нахъе тун рукӏаго, цо заманалдассан Царацца абунила: Рачӏа гьадаб моххмохх бищун цӏакъаб макьу бихьаразе кьезе, - ян. Бакьучги разилъанила. Реганила кьижизе. Бакьуч, бачӏинахъего бегун, кьижун биччан танила. Гьеб кьижарабго, бахъун Царацца гьеб моххмохх кванила. Бакъараб Бакьучида гӏемер меххалълъ кьижизе кӏвечӏила. Гьелълъ, тункун Церги бахъине гьабун, абунила: Гьа, бице дуда бихьараб макьу, - ян. Царацца абунила: Цин дуцца бице, - ян. Дида хханассул васассе чӏчӏужу ячунеб бертин бихьана, гьаниб гӏемер кепалда гьекъолел, кваналел рукӏана, кьолеб батӏи-батӏияб кунеб жоги букӏана, - ян бицанила Бакьучицца. Царацца абунила: Гьеле гьедин, берталълъ мун букӏинги лъан, дицца, мун кьижараб меххалълъ, моххмохх кванахха, - ян. Мискин Бакьучицца гьелде данде абунила, бихъагийин дур чехь, дуцца макьил бицараб меххалълъго, жиб щаклъун букӏанин, цощинаб хӏила гьабизехъинцин батичӏонихха гьаб болъониццаян. Макьилӏ квараб квеналдалъун Бакьучил чехь гӏорцӏцӏичӏила, гьеб гъарин, бакъуцца хвезе дагьаб ххутӏанила. Ххадубги Бакьучицца Царада абунила, гьалмагъзабазда гьоркьоб гуребги, жиндирго эбел-инссуда гьоркьобцин Царацца хӏила гьабулилан рагӏун букӏанин, гьанже дир гьелда ракӏчӏчӏанила. Жакъа къоялдасса нахъе тӏокӏаб дуда дун бихьизе гьечӏила, дида мун бихьулареб гӏадин, тӏокӏаб нилӏеда гьоркьоб гьудуллъиги гьечӏила. Дургун гьудуллъиги гьабизегӏан, гьойдулгун гьудуллъи гьаби гӏезегӏан лълъикӏилан. Гьанже Цер гӏодизе, ахӏдезе лӏугьанила, мун гӏадинаб лълъикӏаб гьудулги батӏалъун, жинда дунялалда букӏине кӏоларилан. Гьелдасса ххадуб гьелълъ, гьедун, рагӏи кьунила жакъа къоялдасса нахъе жинцца Бакьуч бакъун теларин, жибго бакъун букӏанигийилан, щайгурелълъул, гьеб цадахъ гьечӏого, жиндиего гӏураб квен батизе гьелда кӏолеб букӏинчӏого. Гӏабдал Бакьучги гьелълъул рагӏуда божанила, гьанжеги гьалълъулгун гьудуллъиялда чӏчӏанила. Гьелдасса ххадуб анлӏго-анкьго къоялълъ нахъасса къотӏичӏого квине жо балагьулелги рукӏун, гьезда цо гьанал кесек батанила. Кутакалда ссвакарал гьел цо нохъода кьижанила. Макьилӏ Бакьуч цо рахӏат хун лӏугьанила. Гьеб, бигьун бергун, балагьанила, бугилахха Цер, гьеб гьанал кесекги кун, гӏорцӏцӏичӏеб меххалълъ, босун Бакьучил чохьода каратӏги бахъун, гьелълъул бакьал харцӏунеб. Кӏанцӏун тӏаде бахъанила Бакьуч. “Дуцца гьабулеб жо щиб? – ан ахӏданила, - гьанжелъагӏан дуцца гьабураб жо гьадингояб жо букӏана, гьанже дие гьабураб жоялде данде ккун, дицца мун, кибе кӏанцӏаниги, тезе гьечӏо!” Ццебе Цер тӏуранила, ххадуб Бакьуч бортанила, гьедин унел гьел цо кьурул рагӏалде щванила. Царацца рачӏчӏ ццебеххун хьвагӏанила, рачӏчӏалда ххадуб хапулаго, Бакьуч кьурулӏа гъоркье реххун анила, гӏодобги речӏчӏун, бетӏер беканила. Тӏасса гъоркьеги балагьун, Царацца абунила: “Гьанже балагьилин”, - илан. Гьединги абун, Цер, ахӏулаго кечӏгун, анила. cergi bapuxgi cergi bapuxgi rujanila judiyal halmaGRabi. hel co sordoya' xanare anila, cingi heRu]e ?wanila co mo{mo{. heR \ukmu habunila heb bi?un raqarab Ramanalde na]e teRe. hedin hebgi na]e tun rujago, co RamanaldaSan caraCa abunila raza hadab mo{mo{ bi?un vaqab mapu biFaraRe peRe, - yan. bapuxgi raRi;anila. reganila piDiRe. bapux, bazina]ego begun, piDun biXan tanila. heb piDarabgo, ba]un caraCa heb mo{mo{ kwanila. baqarab bapuxida femer me{a' piDiRe jwezila. he', tunkun cergi ba]ine habun, abunila ha, bice duda biFarab mapu, - yan. caraCa abunila cin duCa bice, - yan. dida {anaSul wasaSe ZuDu yaxuneb bertin biFana, hanib femer ke<alda heqolel, kwanalel rujana, poleb baTi-baTiyab kuneb Dogi bujana, - yan bicanila bapuxiCa. caraCa abunila hele hedin, berta' mun bujingi ;an, diCa, mun piDarab me{a', mo{mo{ kwana{a, - yan. miskin bapuxiCa helde dande abunila, bi]agiyin dur xeF, duCa mapil bicarab me{a'go, Dib ?ak;un bujanin, co?inab \ila habiRe]incin batizoni{a hab bo;oniCayan. mapi` kwarab kwenalda;un bapuxil xeF forVizila, heb Garin, baquCa [weRe dahab {uTanila. {adubgi bapuxiCa carada abunila, halmaGRabaRda horpob gurebgi, Dindirgo ebel-inSuda horpobcin caraCa \ila habulilan rafun bujanin, hanDe dir helda rajZanila. Daqa qoyaldaSa na]e Tojab duda dun biFiRe hezila, dida mun biFulareb fadin, Tojab ni`eda horpob hudul;igi hezila. durgun hudul;igi habiRefan, hoydulgun hudul;i habi feRefan 'ijilan. hanDe cer fodiRe, a\deRe `uhanila, mun fadinab 'ijab hudulgi baTa;un, Dinda dunyalalda bujine jolarilan. heldaSa {adub he', hedun, rafi punila Daqa qoyaldaSa na]e DinCa bapux baqun telarin, Dibgo baqun bujanigiyilan, ?aygure'ul, heb cada] hezogo, Dindiyego furab kwen batiRe helda joleb bujinzogo. fabdal bapuxgi he'ul rafuda boDanila, hanDegi ha'ulgun hudul;iyalda Zanila. heldaSa {adub an`go-anpgo qoya' na]aSa qoTizogo kwine Do balahulelgi rujun, heRda co hanal kesek batanila. kutakalda Swakaral hel co no]oda piDanila. mapi` bapux co ra\at [un `uhanila. heb, bihun bergun, balahanila, bugila{a cer, heb hanal kesekgi kun, forVizeb me{a', bosun bapuxil xoFoda karaTgi ba]un, he'ul bapal [arvuneb. janvun Tade ba]anila bapux. “duCa habuleb Do ?ib& – an a\danila, - hanDe;afan duCa haburab Do hadingoyab Do bujana, hanDe diye haburab Doyalde dande Kun, diCa mun, kibe janvanigi, teRe hezo!” Cebe cer Turanila, {adub bapux bortanila, hedin unel hel co purul rafalde ?wanila. caraCa raZ Cebe{un Fwafanila, raZalda {adub [a<ulago, bapux puru`a Gorpe re{un anila, fodobgi reZun, beTer bekanila. TaSa Gorpegi balahun, caraCa abunila - “hanDe balahilin”, - ilan. hedingi abun, cer, a\ulago kezgun, anila.

  • Мали бичулев | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    МАЛИ БИЧУЛЕВ Мала Нассрудинил мадугьалассул букӀун буго лълъикӀаб пихъил ах, пайдани щиб, гьев цӀакъ бараххщарав чи вукӀун вуго, ахида ссверун борххатаб къедги букӀун буго. Мадугьал рокъов гьечӀеб гӀадаб заманги балагьун, Мала Нассрудиницца хӀукму гьабун буго пихъ квине гьессул ахикье лӏугьине. Жиндирго мали чІван, цин гъоркье ахикье лӏугьун вуго гьев, цинги ххадуб малиги цо борххатаб гъотӀода базабун, гьеб гъотӀодасса пихъ кунев вукӀун вуго. ТӀаде вачӀун вуго ахил бетӀергьан. Гьесс абун буго: - Мадугьал, дуцца гьаниб гьабулеб щиб? - ан. - Беццавги гьечӀелълъул, бихьуларогойищ бугеб дуда! - ян ахІданила Мала Нассрудин. - Дун гьаниве мали бичизе вачӀун вукӀана. - Малал ричулеб бакӀищ гьаб дуе бугеб? – ан кӏалъанила ахихъан. - Босулев чи вугони, бокьараб бакӀалда бегьула мали бичизе, - ян абунила Мала Нассрудиницца. mali bixulew mala naSrudinil maduhalaSul bujun bugo 'ijab <i]il a[, <aydani ?ib, hew vaq bara{?araw xi wujun wugo, a[ida Swerun bor{atab qedgi bujun bugo. maduhal roqow hezeb fadab Ramangi balahun, mala naSrudiniCa \ukmu habun bugo <i] kwine heSul a[ipe `uhine. Dindirgo mali zwan, cin Gorpe a[ipe `uhun wugo hew, cingi {adub maligi co bor{atab GoToda baRabun, heb GoTodaSa <i] kunew wujun wugo. Tade wazun wugo a[il beTerhan. heS abun bugo - maduhal, duCa hanib habuleb ?ib& - an. - beCawgi heze'ul, biFularogoyi? bugeb duda! - yan a\danila mala naSrudin. - dun haniwe mali bixiRe wazun wujana. - malal rixuleb baji? hab duye bugeb& – an ja;anila a[i]an. - bosulew xi wugoni, boparab bajalda behula mali bixiRe, - yan abunila mala naSrudiniCa.

  • Уцумиххан | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    УЦУМИХХАН Цо росулӏ вукӀун вуго Уцумиххан абулев ххан. Боцӏцӏи-рикъзи букӀин гурони, гьессул щибго гӀелму букӀун гьечӀо. Гьессие бищунго бокьулеб жо букӀун буго гӀадамаз жиндие рецц-бакъ гьаби. Жиндие гьабураб реццалълъухъ кьолеб жоялде гьев вачӀунев вукӀун гьечӏо. Росдал гӀадамал гьессукьа цӀакъ нахъе къалел рукӀун руго. Гьессул рекӀеда унтулеб жо гьабизе лълъиданиги кӀолеб букӀун гьечӀо. Гьесс абураб жоялде инкар гьабизе кӀолев чиги щивниги вукӀун гьечӀо. Гьединаб къадру-къиматалда вукӀинги гӀечӀого, гьессие къваригӀун буго дибир-будунасс, дугӀа-алхӀам гьабулаго, гьединго диниял гара-чІвариял гьарулаго, цогидал цӏцӏар рагӀарал гӀадамазда гъорлӏ жиндирги цӀцӏар реххссезе. Гьелдалъун гьессул мурадги букӀун буго живги, жиндир туххум-кьибилги, умумул-гӀагарлъиги гӀарабазул цӀцӏар бугеб туххумалдасса рачӀаралилан ххалкъалда рагӀизабизе. Гьединлъидал гьесс цо къоялда ххутӏба гьабизе рузманалда вахъине кколев вукӀарав мутагӀилассда абун буго жиндир цӀцӏарги цо нухалдагӀаги ххутӀбаялълъулӏ реххссеян. Гьелълъухъ, жинцца дуе кӀиго куй кьелинги абун буго. ЛълъикӀ бугилан, мутагӀилги разилъун вуго. Цо рузман къоялда гьев мутагӀил ххутӀба гьабизе вахъун вуго. Ххутӏба гӀараб мацІцӏалда гьабулеб букӀун буго. Ххутӏба гьабулаго, мутагӀиласс гӀараб мацІцӏалълъ Уцумихханассдеххун гьадин абун буго: - Я Уцумиххан! Гьединаб кӀудияб гьвелъун мун гьавурав Аллагьассе щибаб рецц буго, гьадал дур берцинал ясал мутагӀилзабазе вакъпулъун гьарурав Аллагьассе щибаб рецц буго! - ян. ГӀодов вукӀун мутагӀилассухъ гӀенеккун вукӀарав дибир цӀакъго виххун лӏугъун вуго. - Вахӏ, дуцца бицунеб щиб? - анги абун, гьев кӀанцӀун тӀаде вахъун вуго. Мажгиталъур рукӀарал гӀадамалги цоцахъ ралагьун, чІваркьун ххутӀун руго. Гьебмеххалълъ мутагӀиласс гӀараб мацІцӏалда дибирассда гьадин абун буго: - Мун вуцӏцӀун чӀчӏа, ххутӀбаялълъулӏ жиндир цӀцӏар реххссаралълъухъ Уцумихханасс дие кӀиго куй кьезе къотӀи гьабун буго, гьелълъул цояб дицца дуеги кьела, - ян. ХхутӀбаялълъулӏ мутагӀиласс цогидал машгьурал гӀадамазда гьоркьоб жиндирго цӀцӏар реххссаралълъухъ, Уцумихханассги гьессие кӀиго куй кьун буго, жиндир цӀцӏар мутагӀиласс кинаххун реххссарабали лъачӀого. ucumi{an co rosu` wujun wugo ucumi{an abulew {an. boCi-riqRi bujin guroni, heSul ?ibgo felmu bujun hezo. heSiye bi?ungo bopuleb Do bujun bugo fadamaR Dindiye reC-baq habi. Dindiye haburab reCa'u] poleb Doyalde hew wazunew wujun hezo. rosdal fadamal heSupa vaq na]e qalel rujun rugo. heSul rejeda untuleb Do habiRe 'idanigi joleb bujun hezo. heS aburab Doyalde inkar habiRe jolew xigi ?iwnigi wujun hezo. hedinab qadru-qimatalda wujingi fezogo, heSiye qwarifun bugo dibir-budunaS, dufa-al\am habulago, hedingo diniyal gara-zwariyal harulago, cogidal Var rafaral fadamaRda Gor` Dindirgi Var re{SeRe. helda;un heSul muradgi bujun bugo Diwgi, Dindir tu{um-pibilgi, umumul-fagar;igi farabaRul Var bugeb tu{umaldaSa razaralilan {alqalda rafiRabiRe. hedin;idal heS co qoyalda {uTba habiRe ruRmanalda wa]ine Kolew wujaraw mutafilaSda abun bugo Dindir Vargi co nu[aldafagi {uTbaya'u` re{Seyan. he'u], DinCa duye jigo kuy pelingi abun bugo. 'ij bugilan, mutafilgi raRi;un wugo. co ruRman qoyalda hew mutafil {uTba habiRe wa]un wugo. {uTba farab maValda habuleb bujun bugo. {uTba habulago, mutafilaS farab maVa' ucumi{anaSde{un hadin abun bugo - ya ucumi{an! hedinab judiyab hwe;un mun hawuraw alahaSe ?ibab reC bugo, hadal dur bercinal yasal mutafilRabaRe waq<u;un haruraw alahaSe ?ibab reC bugo! - yan. fodow wujun mutafilaSu] feneKun wujaraw dibir vaqgo wi{un `uhun wugo. - wa\, duCa bicuneb ?ib& - angi abun, hew janvun Tade wa]un wugo. maDgita'ur rujaral fadamalgi coca] ralahun, zwarpun {uTun rugo. hebme{a' mutafilaS farab maValda dibiraSda hadin abun bugo - mun wuVun Za, {uTbaya'u` Dindir Var re{Sara'u] ucumi{anaS diye jigo kuy peRe qoTi habun bugo, he'ul coyab diCa duyegi pela, - yan. {uTbaya'u` mutafilaS cogidal ma/hural fadamaRda horpob Dindirgo Var re{Sara'u], ucumi{anaSgi heSiye jigo kuy pun bugo, Dindir Var mutafilaS kina{un re{Sarabali ;azogo.

  • Щудукӏай | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЩУДУКІАЙ ЙикӀанила, йикӀинчӀила, ЩудукӀалълъул щуго яс йикӀанила. Цо къоялълъ ЩудукӀалълъ ясазе карщ гьабунила. Гьеб чӀчӏикӀизе гъудал ратичӀила. Пайда гьечӀилан, ЩудукӀай гъудазе цӀул къотӀизе рохьое анила. Рохьое унаго, гьелда данде кканила цо БацІ. БацІицца гьикъанила: - Кие мун уней йигей? - ан. - Дунали рохьое уней йиго. Верехха, дуцца гьадал дир лъимал квине гурин! Рахан нуцӀцӏагин таралин дицца гьел, - анги абун, ЩудукӀай рохьое ялагьун анила. Гьеб рагӀаги дир гӀиндаян, БацІ, боххиялълъ, лъабцӀцӏул кӀанцӀун, ЩудукӀалълъул рагьде щванила. - ЩудукӀалълъул щуго яс, нуцӀцӏа ричӀе, эбелхвадал! - ан ахӀанила. - Рагьиларо, мун нижер эбел гуро, нижер эбел баргъичазул килщал цӀурай, курхьабазул гъажал цӀурай йикӀана, - ян абунила ясаз. Цинги БацӀицца, рохьобеги ун, пенкьелодул курхьаби гьарунила, макъаридул баргъичал гьарунила. ТӀадбуссун лъималазул кӀалтӀе щванила. НуцӀцӏил картӀиниссан баргъичалги, курхьабиги рихьун тун ххадуб, ясаз БацІ жанибе биччан танила. Жанибе борчӀарабго, БацӀицца цо яс мокърукь яххчанила, цо яс ссанкӀида нахъа къазаюнила, цояй рохъдолӏ къазаюнила, кӀиго яс кванила. ЩудукӀалълъул гьацӀцӏул, нахул, хьодол хъуби рукӀанила, гьелги чӀчӏикӀанила. ТӀири течӀого карщги чӀчӏикӀанила, кутакалда чехьги цӀун, БацІ цо бакӀалда бегизе анила. Гьениб рахӀаталда кьижанила. ЩудукӀай рокъое юссанила: цониги яс гьечӀила. - ЩудукӀалълъул щуго яс, кир ругел, эбелхвадал! - ан ахІданила. Дун гьаний йигоян цояй ссанкӀида нахъассан ахІданила. Дун гьаний йигилан цояй мокърукьан, цояй рохъдолӏан ахІданила. КӀигояй тӀагӀун ятанила. ГӀоданила, йортанила, чӀичӀиданила, хъвагӀданила, хъерщеданила, тӀирщаданила. Карщалде йортани, карщ гьечӀила, нахуде, гьоцӀцӏоялде якканила - гьебги гьечIила. Чараги бухӀун, чуриги бухӀун ххутӀанила. БацӀие гьабизе кӀолеб щибниги жо бугебани, ясалго кІваричӀоанилан, ЩудукӀай кьвагьулей, юхӀулей йикӀанила. Щудукӏалде асскӀобе зигара гьабун Цер бачӀанила. Гьелълъ ЩудукӀалда абунила, Бацӏие хӀила жинцца гьабилин, жиндие тӀатӀулӏ ххинкӀалги гьаруни, квасул бусенги тӀамунийилан. ЩудукӀайги гьелда рекъанила. Къассаде ЩудукӀалълъ ясазеги жиндиегоги тӀатӀулӏ ххинкӀал гьарунила, Царае тӀорччол ххинкӀал гьарунила. ХхинкӀал кунеб меххалълъ, Цер ххинкӀазул лълъахь-лълъахьи бугилан зигарданила, гьеб дурго ца-кӀалалълъул чӀахӀалъиялълъул жо бугилан, ЩудукӀалълъги абунила. Регизе мехх щванила. Яхъун ЩудукӀалълъ Царае зазил бусен тӀамунила. Ясазеги жиндиегоги квас-квасул бусен тӀамунила. Цер, бусен хӀенчолеб бугилан, зигарданила. ЩудукӀалълъ гьеб дурго ракьа-гьаналълъул чӀахӀалъиялълъ бугеб жо бугилан абунила. Абухъего, гьеб гьедин батизе бегьулилан, зигара тун, Цер кьижанила. Радал Цер къватӀибе бахъанила, БацӀида ххадуб лӏугьанила. Рохьоб добе баккун, гьанибе баккун, Бацӏ балагьанила. АсскӀобе билълъун, гара-чІваранила. Гьадин-гьадинан гьоркьоб гьудул-гьалмагълъи ккезабунила, цо хъещтӀезе ун лълъикӀ гуродаян тӀаделъанила. БацІ цӀакъ букӀкӀуркӀахъданила. Чехьги цӀун букӀаго, хъещтӀезего щай абун зигарданила. Жибго бегун букӀун, Царал ххабар-кӀалалълъухъ гӀенеккун чӀчӏезе бокьун букӏанила БацӀие. Цер кинго тӀасса бичӀичӀила, хъещтӀезе бачанила. Цин рахъун чӀчӏун хъещтӀанила, гьанже гӀодор чӀчӏун хъещтӀон лълъикӀин, гьанже «мукӀусгъей» гьабун лълъикӀилан, Царацца батӀи-батӀиял къагӀидаби малълъанила. Бищун ссанагӀатаб куц ккарабго, Цер БацӀида гъоркье кӀущанила. Бацӏ цӀцӏералда рекӀун ххутӀанила. Гьебмеххалълъ Цер, - махил росе, миккил росеян ахІданила. Щудукӏай тӀилалгун, гӀурдулгун тӀаделъанила. БацӀида гӀадалӏ цо тӀил банила, магӀарзухъан цояй яс къватӀие кӀанцӀун ячӀанила, цоги банила - цоги кӀанцӀун ячӀанила. Гьагъадин балаго, хьодол, нахул, гьацӀцӏул хъуби, карщ турхьиялда къватӀире ралел рукӀанила. Ццим буссунарого, ЩудукӀай кьабулейго-кьабулей йикӀанила. БацӀиде цӀакъго хӀал кканила. Бахъун туркӀанила, цӀцӏороде кӀудияб тӀомги бахъун бачӀанила, БацІги борчӀанила. БацІ борчӀарабго, Цер лӏутанила - БацІ ххадуб бортанила. Цер цо картӀинибе борчӀун унеб букӀанила, БацӀихъе рачӏчӏ кквезе щванила гьелълъул. Царацца гьебмеххалълъ БацӀиде ахӀанила: - Дир рачІчӏ кквезе щвечӀеб жо! КӀалдиб тӀурччи ккураб жо! - ян. - Вагь! Дир кӀалдибе ккараб жо рачІчӏ гуреб, тӀурччидай, - ан, БацӀицца кӀал гьакӀкӀанила. Цер тӀубан картӀинибе борчӀанила. Квараб щинабги магӀарзухъан бачӀун, Церги кодосса борчӀун ххутӀанила БацІ. Нахъе балагьалдасса цӀунагиян, ясалги данде рачун, ЩудукӀайги танила. ?udujay yijanila, yijinzila, ?uduja'ul ?ugo yas yijanila. co qoya' ?uduja' yasaRe kar? habunila. heb ZijiRe Gudal ratizila. <ayda hezilan, ?udujay GudaRe vul qoTiRe roFoye anila. roFoye unago, helda dande Kanila co bav. baviCa hiqanila - kiye mun uney yigey& - an. - dunali roFoye uney yigo. were{a, duCa hadal dir ;imal kwine gurin! ra[an nuVagin taralin diCa hel, - angi abun, ?udujay roFoye yalahun anila. heb rafagi dir findayan, bav, bo{iya', ;abVul janvun, ?uduja'ul rahde ?wanila. - ?uduja'ul ?ugo yas, nuVa rize, ebel[wadal! - an a\anila. - rahilaro, mun niDer ebel guro, niDer ebel barGixaRul kil?al vuray, kurFabaRul GaDal vuray yijana, - yan abunila yasaR. cingi baviCa, roFobegi un, <enpelodul kurFabi harunila, maqaridul barGixal harunila. TadbuSun ;imalaRul jalTe ?wanila. nuVil karTiniSan barGixalgi, kurFabigi riFun tun {adub, yasaR bav Danibe biXan tanila. Danibe borzarabgo, baviCa co yas moqrup ya{xanila, co yas Sanjida na]a qaRayunila, coyay ro]do` qaRayunila, jigo yas kwanila. ?uduja'ul haVul, na[ul, Fodol ]ubi rujanila, helgi Zijanila. Tiri tezogo kar?gi Zijanila, kutakalda xeFgi vun, bav co bajalda begiRe anila. henib ra\atalda piDanila. ?udujay roqoye yuSanila, conigi yas hezila. - ?uduja'ul ?ugo yas, kir rugel, ebel[wadal! - an a\danila. Dun haniy yigoyan coyay Sanjida na]aSan a\danila. dun haniy yigilan coyay moqrupan, coyay ro]do`an a\danila. jigoyay Tafun yatanila. fodanila, yortanila, zizidanila, ]wafdanila, ]er?edanila, Tir?adanila. kar?alde yortani, kar? hezila, na[ude, hoVoyalde yaKanila - hebgi hezila. xaragi bu\un, xurigi bu\un {uTanila. baviye habiRe joleb ?ibnigi Do bugebani, yasalgo jwarizoanilan, ?udujay pwahuley, yu\uley yijanila. ?udujalde aSjobe Rigara habun cer bazanila. he' ?udujalda abunila, baviye \ila DinCa habilin, Dindiye TaTu` {injalgi haruni, kwasul busengi Tamuniyilan. ?udujaygi helda reqanila. qaSade ?uduja' yasaRegi Dindiyegogi TaTu` {injal harunila, caraye TorXol {injal harunila. {injal kuneb me{a', cer {injaRul 'aF-'aFi bugilan Rigardanila, heb durgo ca-jala'ul za\a;iya'ul Do bugilan, ?uduja'gi abunila. regiRe me{ ?wanila. ya]un ?uduja' caraye RaRil busen Tamunila. yasaRegi Dindiyegogi kwas-kwasul busen Tamunila. cer, busen \enxoleb bugilan, Rigardanila. ?uduja' heb durgo rapa-hana'ul za\a;iya' bugeb Do bugilan abunila. abu]ego, heb hedin batiRe behulilan, Rigara tun, cer piDanila. radal cer qwaTibe ba]anila, bavida {adub `uhanila. roFob dobe baKun, hanibe baKun, bav balahanila. aSjobe bi'un, gara-zwaranila. hadin-hadinan horpob hudul-halmaG;i KeRabunila, co ]e?TeRe un 'ij gurodayan Tade;anila. bav vaq buJurja]danila. xeFgi vun bujago, ]e?TeRego ?ay abun Rigardanila. Dibgo begun bujun, caral {abar-jala'u] feneKun ZeRe bopun bujanila baviye. cer kingo TaSa bizizila, ]e?TeRe baxanila. cin ra]un Zun ]e?Tanila, hanDe fodor Zun ]e?Ton 'ijin, hanDe «mujusGey» habun 'ijilan, caraCa baTi-baTiyal qafidabi ma'anila. bi?un Sanafatab kuc Karabgo, cer bavida Gorpe ju?anila. bav Veralda rejun {uTanila. рebme{a' cer, - ma[il rose, miKil roseyan a\danila. ?udujay Tilalgun, furdulgun Tade;anila. bavida fada` co Til banila, mafarRu]an coyay yas qwaTiye janvun yazanila, cogi banila - cogi janvun yazanila. haGadin balago, Fodol, na[ul, haVul ]ubi, kar? turFiyalda qwaTire ralel rujanila. Cim buSunarogo, ?udujay pabuleygo-pabuley yijanila. bavide vaqgo \al Kanila. ba]un turjanila, Vorode judiyab Tomgi ba]un bazanila, bavgi borzanila. bav borzarabgo, cer `utanila - bav {adub bortanila. cer co karTinibe borzun uneb bujanila, bavi]e raZ KweRe ?wanila he'ul. caraCa hebme{a' bavide a\anila - dir raZ KweRe ?wezeb Do! jaldib TurXi Kurab Do! - yan. - wa\! dir jaldibe Karab Do raZ gureb, TurXiday, - an, baviCa jal haJanila. cer Tuban karTinibe borzanila. kwarab ?inabgi mafarRu]an bazun, cergi kodoSa borzun {uTanila bav. na]e balahaldaSa vunagiyan, yasalgi dande raxun, ?udujaygi tanila.

  • Бихьараб щинаб | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    БИХЬАРАБ ЩИНАБ БИЦИНЕ ККОЛАРО Цо улкаялда вукӀун вуго цӀакъ бечедав ххан. Гьессул бетӀералда букӀун буго буртӀинкилищ гӀанассеб лӏар. Гьеб лӏар гьессда жиндагоги гьессул мегеж-бетӀер кӀкІвалев цо ххассав чияссдаги гурони нахъиязда лъалеб букӀун гьечӀо. Цо заманалдассан хун вуго гьессул мегеж-бетӀер кӀкІвалев чи. Гьебмеххалда хханассде кӀудияб ургъел ккун буго. Мегеж-бетӀер кӀкІвазе цоги цӀцӏодорав гӀадав чи валагьун вуго гьесс. Хханасс гьессда абун буго: - Дуе дицца гӀурабгӀан гӀарацги кьела, вукӀине лълъикӏаб рукъги кьела, дуццани гьаб дир бетӀералда бугеб лӏар цоги чияссда бицани, дицца мун чІвазе вуго, - ян. Гьев чиясс рагӀи кьун буго лълъиданиги гьеб балъголъи къватӀиб жинцца бицинарилан. Гьеб къоялдассани нахъе гьеб мегеж-бетӀер кӀкІвалев чи лъалаго тӀад вакъвазе лӏугьун вуго. Гьессие бокьун буго лълъида букӀаниги хханассул бетӀералда лӏар букӀин бицине. Бицани, чІвалин абураб жоялдассаги хӀинкъун, бицинчӀого яхІ гьабизеги кӀоларого, тату хун вукӀун вуго гьев чи. Аххиралдаги гьев цо къоялда магъилӏе къватӀиве вахъун вуго, цо бахараб муцӀцӏи бугеб бакӀалде жанивеги ун, гьев чиясс лъабго нухалда гьадин абун буго жинццаго жиндаго: «Нилӏер хханассул бетӀералда буртӀинкилищ гӀанассеб лӏар буго», — ян. Гьебмеххалда гьев чи цо унти тӀасса араб гӀадин лӏугьун вуго, цинги тӀадвуссун рокъове вачӀун вуго. Гьеб муцӏцӏи бугеб бакӏалда ссверухъ гӀи кваназабулев вукӀун вуго цо вехь. ЧӀалгӀунги вукӀун, гьев вехьасс, муцӀцӏидулӏа къотӀун, жиндиего цо лалу гьабун буго, гьебги пузе байбихьун вуго. Кинаб бакъан лалуялдасса бачӏаниги, гьелълъ абизе лӏугьун буго: «Нилӏер хханассул ботІрода буртӀинкилищ гӀанаб лӏар буго», - ян. Вехьасс гьелда цӀакъ гӀажаиблъи гьабун буго. Ссверухъ ругел гӀадамаздаги рагӀун буго гьеб ххабар. Аххиралда гьеб ххабар живго хханассдаги рагӀун буго. Хханассул кутакалда ццин бахъун буго, цинги жиндирго мегеж-бетІер кІкІвалев чиги асскӀове ахӀун, гьессда лъазабун буго: - Дуцца дир суалалълъе гьересси бицани, дицца мун чӏвазе вуго. БитӀараб бицани, рахІму гьабун, тезеги бегьула. Дуцца дида бице дир бетӀералда лӏар бугилан дуцца лълъиданиги абунищ, абичӀищ? - ан. Хханассе гьесс жаваб кьун буго: - Дур бетӀерчӀахъад, дуцца цӀакъго кьваризабун, къватӀиб бицани, чӀвалин абун, лъазабун букӀинчӀебани, дур бетӀералда лӏар букӀиналълъул дицца цо гьедигӀан кІвар гьабичӀого тезеги бегьулаан. Дуццани, лълъидаго бицунгеян, кӀудияб хӀинкъиги кьун, лъазабуралдасса ххадуб, дида битӀахъе унти ккана. Аххиралдаги, тату хварав чи дун цо къоялълъ магъилӏе ана, цинги бахараб муцӀцӏи бугеб бакӀалде жанивеги лӏугьун, лъабго нухалда бигьа гьабун диццаго дидаго абуна дур бетӀералда лӏар бугилан, - ан. Ххалкъалда жиндир балъголъиги тӀатиндал, битӀахъе мукӀурлъун гьев чияссги бициндал, хханасс гьев чІвачӏого тун вуго. biFarab ?inab bicine Kolaro co ulkayalda wujun wugo vaq bexedaw {an. heSul beTeralda bujun bugo burTinkili? fanaSeb `ar. heb `ar heSda Dindagogi heSul megeD-beTer Jwalew co {aSaw xiyaSdagi guroni na]iyaRda ;aleb bujun hezo. co RamanaldaSan hun wugo heSul megeD-beTer Jwalew xi. hebme{alda {anaSde judiyab urGelKun bugo. megeD-beTer JwaRe cogi Vodoraw fadaw xi walahun wugo heS. {anaS heSda abun bugo - duye diCa furabfan faracgi pela, wujine 'ijab ruqgi pela, duCani hab dir beTeralda bugeb `ar cogi xiyaSda bicani, diCa mun zwaRe wugo, - yan. hew xiyaS rafi pun bugo 'idanigi heb ba;go;i qwaTib DinCa bicinarilan. heb qoyaldaSani na]e heb megeD-beTer Jwalew xi ;alago Tad waqwaRe `uhun wugo. heSiye bopun bugo 'ida bujanigi {anaSul beTeralda `ar bujin bicine. bicani, zwalin aburab DoyaldaSagi \inqun, bicinzogo ya\ habiRegi jolarogo, tatu [un wujun wugo hew xi. a{iraldagi hew co qoyalda maGi`e qwaTiwe wa]un wugo, co ba[arab muVi bugeb bajalde Daniwegi un, hew xiyaS ;abgo nu[alda hadin abun bugo DinCago Dindago - «ni`er {anaSul beTeralda burTinkili? fanaSeb `ar bugo», — yan. hebme{alda hew xi co unti TaSa arab fadin `uhun wugo, cingi TadwuSun roqowe wazun wugo. heb muVi bugeb bajalda Sweru] fi kwanaRabulew wujun wugo co weF. zalfungi wujun, hew weFaS, muVidu`a qoTun, Dindiyego co lalu habun bugo, hebgi <uRe baybiFun wugo. Kinab bawan laluyaldaSa bazanigi, he' abiRe `uhun bugo - «ni`er {anaSul boTroda burTinkili? fanab `ar bugo», - yan. weFaS helda vaq faDaib;i habun bugo. Sweru] rugel fadamaRdagi rafun bugo heb {abar. a{iralda heb {abar Diwgo {anaSdagi rafun bugo. {anaSul kutakalda Cin ba]un bugo, cingi Dindirgo megeD-beTer Jwalew xigi aSjowe a\un, heSda ;aRabun bugo - duCa dir suala'e hereSi bicani, diCa mun zwaRe wugo. biTarab bicani, ra\mu habun, teRegi behula. duCa dida bice dir beTeralda `ar bugilan duCa 'idanigi abuni?, abizi? - an. {anaSe heS Dawab pun bugo - dur beTerza]ad, duCa vaqgo pwariRabun, qwaTib bicani, zwalin abun, ;aRabun bujinzebani, dur beTeralda `ar bujina'ul diCa co hedifan jwar habizogo teRegi behulaan. duCani, 'idago bicungeyan, judiyab \inqigi pun, ;aRaburaldaSa {adub, dida biTa]e unti Kana. a{iraldagi, tatu [waraw xi dun co qoya' maGi`e ana, cingi ba[arab muVi bugeb bajalde Daniwegi `uhun, ;abgo nu[alda biha habun diCago didago abuna dur beTeralda `ar bugilan, - an. {alqalda Dindir ba;go;igi Tatindal, biTa]e mujur;un hew xiyaSgi bicindal, {anaS hew zwazogo tun wugo.

  • Царал бохх | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Царал бохх Цер битIун буго рохьобе цIулада ххадуб. Рохьобе инаго царал бохх хIарщулӏ къан буго. Царада гъотIода мокъокъ бихьун буго. Цер кIалъан буго мокъокъида дир бохх бацIцIизе гъотIодасса цо тIамах реххеян. – Реххиларо, – ян абун буго мокъокъицца. Гьеб меххалълъ цер кIалъан буго гъедуялда: – Гъеду, ва гъеду, дицца гьарана мокъокъида гъотIодасса дие цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъолълъ реххичIо; реххе дие цо тIамах бохх бацIцIизе. – Реххиларо, – ян абун буго гъедуялълъ. Ххадуб цер кIалъан буго гугоялда. – Гуго, ва гуго, дицца гьарана мокъокъида дие гьотIодасса цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъолълъ реххичIо, дицца гьарана гъедуялда гъолълъги реххичIо; дуццагIаги реххе дие цо тIамах бохх бацIцIизе. – Реххиларо, – ян абун буго гугоялълъ. Цер кIалъан буго цIцӏумалда. – ЦIцӏум, ва цIцӏум, дицца гьарана мокъокъида дие гъотIодасса цо тIамах реххеян, гъолълъ реххичIо, дицца гьарана гъедуялда дие цо тIамах реххеян гъотIодасса, гъолълъги реххичIо, дицца гьарана гугоялда дие цо тIамах реххеян гъотIодасса, гъолълъги реххичIо. ДуццагIаги реххе дие гъотIодасса цо тIамах дир бохх бацIцIизе. – Реххиларо, – ян абун буго цIцӏумалълъ. Аххирги цер кIалъан буго цIцӏунцIцӏраялда. – ЦIцӏунцIра, цIцӏунцIра, дицца гьарана мокъокъида, гъедуялда, гугоялда, цIцӏумида дие гъотIодасса цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъоз реххичIо. ДуццагIаги реххе дие тIамах. ЦIцӏунцIцӏраялъ реххун буго царае бохх бацIцIизе тIамах. Цер, бацIцIун боххгун, ун буго рокъобе.

  • Базарганги васги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    БАЗАРГАНГИ ВАСГИ ВукӀанила, вукӀинчӀила цо шагьаралда цо бечедав базарган, гьессул цо васги ясги рукӀанила. Батӏи-батӀиял шагьаразде даран-базаралълъ гӀемерав унаанила гьев. Цо нухалда базарган кканила цо росулӏе. Гьенив гьев рещтӀанила цо мискинчияссул бакӏалда гьоболлъухъ. Гьев мискинчияссул бугоанила анцӀила кӀиго лъимер. Гьессул чӀчӏужу рокъой гьечӀоанила. Базарганасс гьессда гьикъанила: - ЧӀчӏужу кие арай? - ан. - АнцӀила лъабабизе лъимер гьабизе цояб рокъой егун йиго, - ян абунила гьесс. - Нужер лъималги гӀемерал рихьула, гьанже гьабураб лъимергӀаги дие кье, дицца хьихьила гьеб, - ан абунила базарганасс. Кьезе мискинчиги разилъанила. Гьавунила цо берцинав вас. ЛълъикӀаб хӀалалда эбелалдаги хахизавун, вачун гьев васгун, нахъиссеб къоялълъ базарган вилълъанила рокъове. Рачунаго васассе накабигун, унев вукӀанила базарган. Цо заманалдассан вас гӀодизе лӏугьанила. Базарганассул чара тӀагӀанила, щиб гьабуниги чӀчӏезавизе васги кӀоларого. Аххиралдаги гьесс гьев цо авлахъалда ссанда гъоркь лъун танила, бокьараб ккайин гьанже гьассиеянги абун, живгоги анила. Вас реххун тараб бакӀалда гӀи кваназабулев цо вехь вукӀанила. Гьессул букӀанила щибаб санайил кӀи-кӀи бурутӏ гьабулеб цо цӏцӏе. Гьеб соналда гьабураб кӀиябго бурутӏ гьел къояз хун букӀанила. Цо къоялълъ, рехъадасса рокъове росс вачӀараб меххалълъ, чӏчӏужуялълъ гьессда абунила: - Нилӏер гьаб цІцІе къоялдасса къоялде хӀалакълъулеб буго, гьалълъие лӏугьунеб бугеб жогӀаги лъаларищ дуда? - ян. - Валлагь, щибаб къоялълъ гьеб цӏцӀе, рехъадассаги батӀалъун, цо ссанда гъоркье уна, бакъанида гурони гьенисса нахъбуссунги бачӀунаро. Гьелълъ гьениб гьабулеб жо дидаги лъаларо, - ян абунила россасс. - Щиб батаниги цо гӀила гьечӀого хӀалакълъулеб цІцІе гьаб гуро, цо жакъа дуцца гьалда ххадуб ххал ккве, - ян абунила чӀчӏужуялълъ. Нахъиссеб къоялълъ рехъаде аралълъуб доб цӏцӀе добго ссанда гъоркье анила, ххаду-ххадув вехьги вилълъанила, балагьанила, бугила цо лъимер хахизабулеб. Ункъо-щуго моцӀцӏ бараб гӀадаб берцинаб жинс-куцалълъул лъимер бугила гьеб. Лъимер-бетӀер гьечӀев чиги вукӀун, гьев вехь вохханила, вачун гьев васгун, бакъанида рокъове вилълъанила. - Давла щвана, чӀчӏужу, давла щвана! – ян ахӏданила гьев, азбаралде лӏугьунаго. - Щиб давла? - ян данде ячӀанила чӀчӏужу. - Вас-давла! Вас-давла! - ян гьессги чӀчӏужуялълъул кодове вас вегьанила. Роххун, ххинлъун, чӀчӏезе бакІ лӏугӀун, рукӀанила гьел, ракӀалдаго гьечӀеб бакӀалдасса жидее вас щванилан. ЛълъикӀалдасса лълъикӀаб квине кьун, цӀиялдасса цӀияб ретӏине кьун, хьихьун вукӀанила гьез гьев вас. Гьессги гьезул цӏакъ хӀурмат-хъатир гьабулаанила, гьезие цӀакъ кӀудияб кумек гьессулги букӀанила. Гьединаб къагӀидаялда анцӏила микьго соналде вахунев вукӀанила гьев вас. Цо заманалдассан жиндирго сапаралдасса тӀадвуссун вачӀунев вукӀарав довго базарган кканила гьезухъе сордо базе. Ццевеги цо-кӀиго нухалълъ гьенив рещтӀун вукӀун, гьезул лъимер-бетӀер гьечӀеблъи лъалаанила гьессда. Гьаб нухалда гьезул рокъов гӀолохъанчи гӀолев вас ватараб меххалълъ, тамашалъи гьабун, гьесс гьикъанила: - Нужер лъимер букӀинчӀогури, гьав лълъил вас, кисса вас? - ан. Россассги чӀчӏужуялълъги бицанила базарганассда гьев вас жидее щвараб куц. Базарганассда гьебсагӀат лъанила гьев жинцца ссанда гъоркь реххун тарав вас вукӀин. Васассда бер чӀчӏегӀерлъун, гьев тӀагӀинавизе ракӀалде кканила гьессда. Базарганасс вехьассда абунила: - Гьалмагъзабаз гӀедегӀизавун, къватӀиве сапарал вахъунаго, гӀарац рокъоб ххутӀун, вахъун вуго дун, бегьиларищ дир гӀарац босизе гьев вас витӀизе? - ян. - Щай бегьулареб? ГӀемер цӀакъ бегьила, - ян абунила, щибго жоялда щаклъичӀев вехьасс. Хъван кагъатги кодобе кьун, гьев вас витӀанила базарганасс жиндирго бакӀалде. Гьеб кагътидаги хъван букӀанила гьадин: «Гьав вас, гьениве щвейгун, чІвай», - ан. Васассда хъвазе-цӀцӏализеги лъалароанила, босун кагъатги, вилълъанила вас базарганассул дове. Базарганассул довеги щун, ссвакарав чи гьев гьессул ахикь цо гъотӀода гъоркь гӀодов чӀчӏун вукӀанила. Гордухъан яккун йикӀарай базарганассул ясалда гьев вас вихьанила, вихьигун, гьелълъул рокьи кканила гьессухъ. Яс йихьарайго, васасс тӀадеги вахъун, гьелълъухъе кагъат кьунила. ЦӀцӏалун балагьанила яс, бугила хъван, гьениве щвейгун, гьев вас чӏвайилан. Бихъ-бихъун гьеб кагъатги реххун, гьей ясалълъ хъванила «Гьениве щвейгун, гьев васассе гьей ясги кье, гьевги нилӏерго дурццлъун гьаве», - ян. Босун гьеб кагъатги кьунила нахъбуссун васассухъе, гьессдаги абунила: - Ма, гьаб кагъат дуцца дир ваццассухъе кье, - ян. Васасс гьеб кагъат базарганассул васассухъе кьунила. Гьессги, ахӀун дибир-будунгун, лъун магьаригун, гьей жиндирго яцц гьев васассеги кьунила, дурццлъун гьавун, гьевги танила. Цо заманалдассан тӀадвуссун вачӀанила базарган. - Гьа, тӀубарабищ дицца дуде битӀараб ругьел? – ан гьикъанила гьесс васассда. ТӀубанилан абунила васасс. - Гьахха, бице кин чІварав, кив вукъарав? - ВахІ, дуцца гьев чІвайилан хъван гьечІоан гури, ясги кьун, дурцц гьавеян бугоан. Диццаги гьедин гьабунахха, васги гьанив, нилӏер бакӀалда вуго, - ян абунила васасс. Базарганассда бичӀчӀанила жив васасс квешго маххссараде ккун вукӀин. Гьанжеги къассд кканила базарганассул вас тӀагӀинавизе. Цо къоялда, жиндаго асскӀовеги ахӀун, базарганасс абунила гьев васассда: - Ма, гьаб кагъатги босун, мун а пуланаб тукада гьан бичулел ругел чагӀазухъе, гьез кьураб гьанги босун, рокъове вачӀа, - ян. Гьеб кагътида хъван букӀанила: «Гьениве щвейгун, гьав вас чІвай» абун. Босун гьеб кагъатги, унев вукӏанила гьев. Данде кканила базарганассул вас. Гьесс гьикъанила, киве мун унев вугеван. Гьаб кагъатги кьун, базаралде гьан бичулел чагӏазухъе гьан босизе витӀун унев вуго, ян абунила гьесс. Дол гьан бичулел чагӀиги базарганасс мухьдахъ ккурал, гьессул хӀалтӀухъаби рукӀанила. - Гьан босизе дуда щиб лъалеб, гьеб кагъатги дихъе кье, дунго ина гьеб босизе, - ян абунила базарганассул васасс. Гьессухъ букӀараб кагъатги босун, живго анила гьан босизе. Васги рокъове тӀадвуссанила. - Гьа, щиб ккараб? Босарабищ гьан? - илан гьикъанила базарганасс азбаралда гьев ватидал, тамашалъиги гьабун. - Дуда щиб лъалеб гьан босизе, дихъе кье кагъатги, дун инилан абун, дур вас ана гьениве, дунги рокъове вилълъана, - ян абунила гьесс. Гьеб рагӀараб меххалълъ, базарган вихха-ххочун лӏугьанила, ххеххго вортанила гьев гьан бичулел чагӀазухъе. - Гьа, щиб ккараб? - ан гьикъанила гьесс. - Гьалехха, дуцца абухъе гьабуна, - ян абун, ботӀрол гӀащтӀиги кьабун, чІван реххун вугев жиндирго вас вихьизавунила базарганассда. Добе-гьанибе къватӀибе ххабар бахъичӀого, жиндирго васги вукъанила базарганасс, гьанже щиб гьабунги гьев вас тӀагӀинавизе щулияб хӀукму кканила гьессул. Щиб гьабизеги нахъе къаларев лъабго чиги ахӀун, гьезда дандбанила базарганасс, кьолеб жоялде жив вачинароанин, гьев вас тӀагӀинавизе къваригӀун бугилан. Ункъассго хӀукму гьабунила, квана-гьекъезейилан авлахъалдеги рахъун, меххтизеги гьавун, гьенив гьев чІвазе. Вачун гьев васгун, квана-гьекъезе гӀемераб жоги босун, цо къоялда гьел рахъанила авлахъалде. Гьенир квананила, гьекъанила, кеп гьабунила. Гьев вас щаклъанила, гьеб жо цо ххассаб мурадалълъе гӀоло гьабулеб букӀиналда. Гьединлъидал гьесс меххтизегӀан жо гьекъечӀила. Бакъги тӀерхьанила, гьез хӀукму гьабунила къасси гьенир, авлахъалдаго регизе. ЛълъикӀ жоги гьекъон, гьелги реганила, гьезул хьолбохъ гьев васги веганила. Гьел кьижараб гӀадинаб заманалда, тӀадеги вахъун, гьев васасс жиндаго тӀад букӀараб басрияб гӀадаб буртина базарганассда тӀад банила, гьессда тӀад букӀараб буртина жиндаго тӀад банила. Щибдай гьелълъул ккелаян, буртинаялда гъоркьан, кьижараб ххвелги гьабун, валагьун чӀчӏун вукӀанила. Цо заманалдассан тӀадеги вахъун, гъов лъабавго гъачагъасс, кесе-кесек гьабун, чІван рехханила базарган, гьев василан ккун. Гьеб ишги гьабун, гьелги анила. ТӀаде вахъун, васги вилълъанила рокъове. Ячанила жиндирго чӀчӏужуги, босанила рокъоб букӀанщинаб къайи-къоноги, рилълъанила гьел дов вехьассул бакӀалде. Вехьассдаги чӀчӏужуялдаги ккараб щинаб жо бицанила гьесс. Кодоб-хъатикь букӀараб жоялдасса ххарж гьабун, цо лълъикӀаб минаги банила. Эбелалда релълъарал ясал, инссуда релълъарал васал гьарунила, аваданаб гӀумруялда гьелги тун, дунги гьаниве щвана. baRargangi wasgi wujanila, wujinzila co /aharalda co bexedaw baRargan, heSul co wasgi yasgi rujanila. baTi-baTiyal /aharaRde daran-baRara' femeraw unaanila hew. co nu[alda baRargan Kanila co rosu`e. heniw hew re?Tanila co miskinxiyaSul bajalda hobol;u]. hew miskinxiyaSul bugoanila anvila jigo ;imer. heSul ZuDu roqoy hezoanila. baRarganaS heSda hiqanila - ZuDu kiye aray& - an. - anvila ;ab~abiRe ;imer habiRe coyab roqoy yegun yigo, - yan abunila heS. - nuDer ;imalgi femeral riFula, hanDe haburab ;imerfagi diye pe, diCa FiFila heb, - an abunila baRarganaS. peRe miskinxigi razi;anila. hawunila co bercinaw was. 'ijab \alalda ebelaldagi [a[iRawun, wachun hew wasgun, na]iSeb qoya' baRargan wi'anila roqowe. raxunago wasaSe nakabigun, unew wujanila baRargan. co RamanaldaSan was fodiRe `uhanila. baRarganaSul xara Tafanila, ?ib habunigi ZeRawiRe wasgi jolarogo. a{iraldagi heS hew co awla]alda Sanda Gorp ;un tanila, boparab Kayin hanDe haSiyeyangi abun, Diwgogi anila. was re{un tarab bajalda fi kwanaRabulew co weF wujanila. heSul bujanila ?ibab sanayil ji-ji buruT habuleb co Ve. heb sonalda haburab jiyabgo buruT hel qoyaR [un bujanila. co qoya', re]adaSa roqowe roS wazarab me{a', ZuDuya' heSda abunila - ni`er hab Ve qoyaldaSa qoyalde \alaq;uleb bugo, ha'iye `uhuneb bugeb Dofagi ;alari? duda& - yan. - walah, ?ibab qoya' heb Ve, re]adaSagi baTa;un, co Sanda ;orpe una, baqanida guroni heniSa na]buSungi bazunaro. he' henib habuleb Do didagi ;alaro, - yan abunila roSaS. - ?ib batanigi co fila hezogo \alaq;uleb Ve hab guro, co Daqa duCa halda {adub {al Kwe, - yan abunila ZuDuya'. na]iSeb qoya' re]ade ara'ub dob Ve dobgo Sanda Gorpe anila, {adu-{aduw weFgi wi'anila, balahanila, bugila co ;imer [a[iRabuleb. unqgo-?ugo moV barab fadab bercinab Dins-kuca'ul ;imer bugila heb. ;imer-beTer hezew xigi wujun, hew weF wo{anila, waxun hew wasgun, baqanida roqowe wi'anila. - dawla ?wana, ZuDu, dawla ?wana! – yan a\danila hew, aRbaralde `uhunago. - ?ib dawla& - yan dande yazanila ZuDu. - was-dawla! was-dawla! - yan heSgi ZuDuya'ul kodowe was wehanila. ro{un, {in;un, ZeRe baj `ufun, rujanila hel, rajaldago hezeb bajaldaSa Dideye was ?wanilan. 'ijaldaSa 'ijab kwine pun, viyaldaSa viyab reTine pun, FiFun wujanila heR hew vas. heSgi heRul vaq \urmat-]atir habulaanila, heRiye vaq judiyab kumek heSulgi bujanila. hedinab qafidayalda anvila mipgo sonalde wa[unew wujanila hew was. co RamanaldaSan Dindirgo sa<araldaSa TadwuSun wazunew wujaraw dowgo baRargan Kanila heRu]e sordo baRe. Cewegi co-jigo nu[a' heniw re?Tun wujun, heRul ;imer-beTer hezeb;i ;alaanila heSda. hab nu[alda heRul roqow folo]anxi folew was watarab me{a', tama/a;i habun, heS hiqanila - nuDer ;imer bujinzoguri, haw 'il was, kiSa was& - an. roSaSgi ZuDuya'gi bicanila baRarganaSda hew was Dideye ?warab kuc. baRarganaSda hebsafat ;anila hew DinCa Sanda Gorp re{un taraw was wujin. wasaSda ber Zefer;un, hew TafinawiRe rajalde Kanila heSda. baRarganaS weFaSda abunila - halmaGRabaR fedefiRawun, qwaTiwe sa<aral wa]unago, farac roqob {uTun, wa]un wugo dun, behilari? dir farac bosiRe hew was wiTiRe& - yan. - ?ay behulareb& femer vaq behila, - yan abunila, ?ibgo Doyalda ?ak;izew weFaS. ]wan kaGatgi kodobe pun, hew was wiTanila baRarganaS Dindirgo bajalde. heb kaGtidagi ]wan bujanila hadin - «haw was, heniwe ?weygun, zway», - an. wasaSda ]waRe-ValiRegi ;alaroanila, bosun kaGatgi, wi'anila was baRarganaSul dowe. baRarganaSul dowegi ?un, Swakaraw xi hew heSul a[ip co GoToda Gorp fodow Zun wujanila. gordu]an yaKun yijaray baRarganaSul yasalda hew was wiFanila, wiFigun, he'ul ropi Kanila heSu]. yas yiFaraygo, wasaS Tadegi wa]un, he'u]e kaGat punila. Valun balahanila yas, bugila ]wan, heniwe ?weygun, hew was zwayilan. bi]-bi]un heb kaGatgi re{un, hey yasa' ]wanila «heniwe ?weygun, hew wasaSe hey yasgi pe, hewgi ni`ergo durC;un hawe», - yan. bosun heb kaGatgi punila na]buSun wasaSu]e, heSdagi abunila - ma, hab kaGat duCa dir waCaSu]e pe, - yan. wasaS heb kaGat baRarganaSul wasaSu]e punila. heSgi, a\un dibir-budungun, ;un maharigun, hey Dindirgo yaC hew wasaSegi punila, durC;un hawun, hewgi tanila. co RamanaldaSan TadwuSun wazanila baRargan. - ha, Tubarabi? diCa dude biTarab ruhel& – an hiqanila heS wasaSda. Tubanilan abunila wasaS. - ha{a, bice kin zwaraw, kiw wuqaraw& - wa\, duCa hew zwayilan ]wan hezoan guri, yasgi pun, durC haweyan bugoan. diCagi hedin habuna{a, wasgi haniw, ni`er bajalda wugo, - yan abunila wasaS. baRarganaSda biZanila Diw wasaS kwe/go ma{Sarade Kun wujin. hanDegi qaSd Kanila baRarganaSul was TafinawiRe. co qoyalda, Dindago aSjowegi a\un, baRarganaS abunila hew wasaSda - ma, hab kaGatgi bosun, mun a <ulanab tukada han bizulel rugel xafaRu]e, heR purab hangi bosun, roqowe waza, - yan. heb kaGtida ]wan bujanila - «heniwe ?weygun, haw was zway» - abun. bosun heb kaGatgi, unew wujanila hew. dande Kanila baRarganaSul was. heS hiqanila, kiwe mun unew wugewan. hab kaGatgi pun, baRaralde han bixulel xafaRu]e han bosiRe wiTun unew wugo, yan abunila heS. dol han bixulel xafigi baRarganaS muFda] Kural, heSul \alTu]abi rujanila. - han bosiRe duda ?ib ;aleb, heb kaGatgi di]e pe, dungo ina heb bosiRe, - yan abunila baRarganaSul wasaS. heSu] bujarab kaGatgi bosun, Diwgo anila han bosiRe. wasgi roqowe TadwuSanila. - ha, ?ib Karab& bosarabi? han& - ilan hiqanila baRarganaS aRbaralda hew watidal, tama/a;igi habun. - duda ?ib ;aleb han bosiRe, di]e pe kaGatgi, dun inilan abun, dur was ana heniwe, dungi roqowe wi'ana, - yan abunila heS. heb rafarab me{a', baRargan wi{a-{oxun `uhanila, {e{go wortanila hew han bixulel xafaRu]e. - ha, ?ib Karab& - an hiqanila heS. - hale{a, duCa abu]e habuna, - yan abun, boTrol fa?Tigi habun, zwan re{un wugew Dindirgo was wiFiRawunila baRarganaSda. dobe-hanibe qwaTibe {abar ba]izogo, Dindirgo wasgi wuqanila baRarganaS, hanDe ?ib habungi hew was TafinawiRe ?uliyab \ukmu Kanila heSul. ?ib habiRegi na]e qalarew ;abgo xigi a\un, heRda dandbanila baRarganaS, poleb Doyalde Diw waxinaroanin, hew was TafinawiRe qwarifun bugilan. unqaSgo \ukmu habunila, kwana-heqeReyilan awla]aldegi ra]un, me{tiRegi hawun, heniw hew zwaRe. waxun hew wasgun, kwana-heqeRe femerab Dogi bosun, co qoyalda hel ra]anila awla]alde. henir kwananila, heqanila, ke< habunila. hew was ?ak;anila, heb Do co {aSab murada'e folo habuleb bujinalda. hedin;idal heS me{tiRefan Do heqezila. baqgi TerFanila, heR \ukmu habunila qaSi henir, awla]aldago regiRe. 'ij Dogi heqon, helgi reganila, heRul Folbo] hew wasgi weganila. hel piDarab fadinab Ramanalda, Tadegi wa]un, hew wasaS Dindago Tad bujarab basriyab fadab burtina baRarganaSda Tad banila, heSda Tad bujarab burtina Dindago Tad banila. ?ibday he'ul Kelayan, burtinayalda Gorpan, piDarab {welgi habun, walahun Zun wujanila. co RamanaldaSan Tadegi wa]un, Gow ;abawgo GaxaGaS, kese-kesek habun, zwan re{anila baRargan, hew wasilan Kun. heb i/gi habun, helgi anila. Tade wa]un, wasgi wi'anila roqowe. yaxanila Dindirgo ZuDugi, bosanila roqob bujan?inab qayi-qonogi, ri'anila hel dow weFaSul bajalde. weFaSdagi ZuDuyaldagi Karab ?inab Do bicanila heS. kodob-]atip bujarab DoyaldaSa {arD habun, co 'ijab minagi banila. ebelalda re'aral yasal, inSuda re'aral wasal harunila, awadanab fumruyalda helgi tun, dungi haniwe ?wana.

  • Батараб ххазина | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    РОССАССДА БАТАРАБ ХХАЗИНА PукӀанила, рукӀинчӀила россги чӀчӏужуги. Цо къоялълъ росс жиндирго биххараб рукъалълъул кьучӏчӏ буххулев вукӀанила. Гьениб гьессда месед-гӀарцул кьабун цӀураб щагӀил хъаба батанила. Гьесс гьеб лълъадухъе цӀунизе кьунила. Гьеб хъабаги чи щаклъулареб гӀадаб бакӀалда баххчун, хъаба букӀараб бакӀалдасса ганчӀалги нахъе ран, чӀчӏужуялълъ гьениб цо чанго ччугӀа баххчанила. Цинги нахъеги гьебго бакӀ бухъейин, цоги щиб бугониги батизе бегьулин россассда гьаранила. ЧӀчӏужуялълъ абухъего, гьениб чанго ччугӀаги батанила россассда. Нахъияб къоялълъ хъахӀлъи балеб заманалълъ яхъун, чӀчӏужуялълъ тӀохдасса гӀебеде бек-бекун бан, бахъухъ щущазабунила, ворчӀизеги гьавун, россассдаги лъазабунила: Ххеххго тӀаде вахъа! Нолӏ бахъухъалълъул цӀцӏад бан буго. ГӀедегӀил гьабе нахъе бакӀаризе! - ян. ГӀажаиблъарав россасс, чӀчӏужугун цадахъ лӏугьун, бакӀарун бахъухъ рокъобе босанила. Цо нухалълъ россасс ракӀалдаго гьечӀого жинда батараб месед-гӀарцул цӀураб хъабил хӀакъалълъулӏ годекӀаниб бицен гьабунила. Гьеб ххабар ххеххго хханассухъе щванила. Хханасс, жиндихъегоги ахӀун, гьессие гӀазаб кьезе байбихьанила ххазина батанищали бицеян. Аххирги гьеб батиялълъе мукӀурлъизе кканила гьев. ЧӀчӏужуялълъин абуни, жинда лъалеб жо гурин гьебилан, тӀубанго инкар гьабунила, россассул анищал ругин, гьединаб ххазинаги батун, бечелъизе ххиял бугин гьессулан. Ххассго гьаб аххираб заманалда гьединал жалазул гӀемерал ххиялал гьарун, бетӀер ссверун гӀадинцин вуго гьев, - ан абунила гьелълъ. КӀиялго, росс-лълъади асскӀореги рачун, цӀехх-рехх гьабураб меххалъги, росс тӀуванго мукӀурлъанила, цинги ххазина хханассухъе кьеян лълъадудаги лъазабунила. ЧӀчӏужуялълъин абуни, жинда бихьараб-рагӀараб жоцин гурин, букӀараб батани, кинаб гьеб букӀараб, кида дихъе гьеб баххчизе кьун букӀарабали жаваб кьеян, тӀалаб гьабунила россассдасса. Россасс гьелда ракӀалде щвезабунила, доб ххазина батараб къоялълъ ганчӀазда гьоркьоб меседил чанго ччугӀаги батанин, цинги нахъияб къоялълъ бахъухъалълъул цӀцӏадги банин. Россассул гьел рагӀабаздасса ххадув ххан рекӀеда ватанила жинцца гӀабдалзабазулгун гара-чІвари гьабулеб букӀиналда, цинги гьездаги паракъат рокъоре аян лъазабунила. Гьедин гукканила мискинчияссул чӀчӏужуялълъ ххан. roSaSda batarab {aRina rujanila, rujinzila roSgi ZuDugi. co qoya' roS Dindirgo bi{arab ruqa'ul puZ bu{ulew wujanila. henib heSda mesed-farcul pabun vurab ?afil ]aba batanila. heS heb 'adu]e vuniRe punila. heb ]abagi xi ?ak;ulareb fadab bajalda ba{chun, ]aba bujarab bajaldaSa ganzalgi na]e ran, ZuDuya' henib co xango Xufa ba{xanila. cingi na]egi hebgo baj bu]ejin, cogi ?ib bugonigi batiRe behulin roSaSda haranila. ZuDuya' abu]ego, henib xango Xufagi batanila roSaSda. na]iyab qoya' ]a\;i baleb Ramana' ya]un, ZuDuya' TohdaSa febede bek-bekun ban, ba]u] ?u?aRabunila, worziRegi hawun, roSaSdagi ;aRabunila {e{go Tade wa]a! no` ba]u]a'ul Vad ban bugo. fedefil habe na]e bajariRe! - yan. faDaib;araw roSaS, ZuDugun cada] `uhun, bajarun ba]u] roqobe bosanila. co nuha' roSaS rajaldago hezogo Dinda batarab mesed-farcul vurab ]abil \aqa'u` godejanib bicen habunila. heb {abar {e{go {anaSu]e ?wanila. {anaS, Dindi]egogi a\un, heSiye faRab peRe baybiFanila {aRina batani?ali biceyan. a{irgi heb batiya'e mujur;iRe Kanila hew. ZuDuya'in abuni, Dinda ;aleb Do gurin hebilan, Tubango inkar habunila, roSaSul ani?al rugin, hedinab {aRinagi batun, bexe;iRe {iyal bugin heSulan. {aSgo hab a{irab Ramanalda hedinal DalaRul femeral {iyalal harun, beTer Swerun fadincin wugo hew, - an abunila he'. jiyalgo, roS-'adi aSjoregi raxun, ve{-re{ haburab me{a'gi, roS Tuwango mujur;anila, cingi {aRina {anaSu]e peyan 'adudagi ;aRabunila. ZuDuya'in abuni, Dinda biFarab-rafarab Docin gurin, bujarab batani, kinab heb bujarab, kida di]e heb ba{xiRe pun bujarabali Dawab peyan, Talab habunila roSaSdaSa. roSaS helda rajalde ?weRabunila, dob {aRina batarab qoya' ganzaRda horpob mesedil xango Xufagi batanin, cingi na]iyab qoya' ba]u]a'ul Vadgi banin. roSaSul hel rafabaRdaSa {aduw {an rejeda watanila DinCa fabdalRabaRulgun gara-zwari habuleb bujinalda, cingi heRdagi <araqat roqore ayan ;aRabunila. hedin guKanila miskinxiyaSul ZuDuya' {an.

  • Бищунго къуватаб | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    БИЩУНГО ЩИБ КЪУВАТАБ? Цо нухалда квачараб ххасало лъарахъе лълъим гьекъезе араб Бече, цIцӏердассан хъуштIун, гӏодоб речӏчӏун буго. Гьеб бихьун буго Бече гьекъезе бачун вачӏарав гьитIинав васассда, Къебедида. Къебедицца Бачида гьикъанила: - Бече, ва Бече, мун цIакъго къуватабищ бугеб, ялъуни дагьгойищ? — ан. - Дун къуватаб букIарабани, гьудул Къебед, дун лълъеда чIвараб цIцӏороцца гIодоб лъелароан, - илан абун буго Бачицца. Васасс ЦIцӏорода гьикъанила: - Цlцӏер, ва Цlцӏер, мун къуватаб бугищ? — ан. - Дун къуватаб букIарабани, Бакъуцца биинабилароан. Васасс Бакъуда гьикъанила: - Бакъ, мун киназдассаго къуватабищ бугеб? - ан. - Киназдассаго дун къуватаб букIарабани, Накlкӏуцца дун баххчилароан. Васасс НакIкIуда гьикъанила: - НакIкI, ва НакIкI, мун ссундассаго къуватабищ бугеб? - ан. - Ссундассаго дун къуватаб бугебани, гIиссинаб ЦIцӏадацца дун бихха-ххочизабилароан. Васасс Цlцӏадада гьикъанила: - ЦIцӏад, мун ссундассаго къуватабищ бугеб? - ан. - Дун ссундассаго къуватаб бугебани, Ракьуцца дун жанибе кIкIвинароан. Васасс Ракьуда гьикъанила: - Бицея, Ракь, мун бищунго къуватабищ кколеб дунялалда? – ян. - Дунялалда дун бищун къуватаб бугебани, дида тIад, Ххер бижилаанищ? Васасс Ххарида гьикъанила: - Ххер, бицея, бищунго къуватаб мунищ кколеб? - ан. - Дун бищунго къуватаб бугебани, дун гIияцца квинароан. Васасс гIияда гьикъанила: - Дир ххириял чахъаби, дунялалда бищунго къуватал нужищ? - ан. - Ниж бищунго къуватал ругелани, вехьасс доре-гьанире хъамилаанищ ниж? - Вехь, бицея, бищун дунялалда къуватав мунищ? -абун гьикъанила Къебедицца. - Дун бищунго къуватав вукIаравани, дир тIомохьитазул чIалал ГIонкIкlоцца квинаандай? - Бицея, Гlункlкl, дунялалда бищунго къуватаб жо мунищ кколеб? - ан гьикъанила васасс. - Дун бищунго къуватаб бугебани, Катицца дун кунебандай? Васасс Катида цIехханила: - Бицея, дир Ицико, гьаб дунялалда бищун къуватаб мунищ кколеб? - ан. - Дун ккола, валлагь! - ан ахIанила Катицца. - Къуватабги дун, цIакъабги дун, квас чIвалеб гьаркьил магIал rIaдал, гIассиял цабиги дир, дун кколеб хьури-къедги гьечIеб, нуцIцӏа-гъалдуги гьечIеб, тIорахь-рахьги цIакъ бокьулеб, михъалги кьурулел дицца. Мив! Мив! Мив! - абун ццебе чIчӏанила Кету. bi?ungo ?ib quwatab& co nu[alda kwaxarab {asalo ;ara]e 'im heqeRe arab bexe, VerdaSan ]u?Tun, fodob reZun bugo. heb biFun bugo bexe heqeRe baxun wazaraw hiTinaw wasaSda, qebedida. qebediCa baxida hiqanila - bexe, wa bexe, mun vaqgo quwatabi? bugeb, ya;uni dahgoyi?& — an. - dun quwatab bujarabani, hudul qebed, dun 'eda zwarab VoroCa fodob ;elaroan, - ilan abun bugo baxiCa. wasaS Voroda hiqanila - Ver, wa Ver, mun quwatab bugi?& — an. - dun quwatab bujarabani, baquCa biinabilaroan. wasaS baquda hiqanila - baq, mun kinaRdaSago quwatabi? bugeb& - an. - kinaRdaSago dun quwatab bujarabani, naJuCa dun ba{xilaroan. wasaS naJuda hiqanila - naJ, wa naJ, mun SundaSago quwatabi? bugeb& - an. - SundaSago dun quwatab bugebani, fiSinab VadaCa dun bi{a-{oxiRabilaroan. wasaS Vadada hiqanila - Vad, mun SundaSago quwatabi? bugeb& - an. - dun SundaSago quwatab bugebani, rapuCa dun Danibe Jwinaroan. wasaS rapuda hiqanila - biceya, rap, mun bi?ungo quwatabi? Koleb dunyalalda& – yan. - dunyalalda dun bi?un quwatab bugebani, dida Tad, {er biDilaani?& wasaS {arida hiqanila - {er, biceya, bi?ungo quwatab muni? Koleb& - an. - dun bi?ungo quwatab bugebani, dun fiyaCa kwinaroan. wasaS fiyada hiqanila - dir {iriyal xa]abi, dunyalalda bi?ungo quwatal nuDi?& - an. - niD bi?ungo quwatal rugelani, weFaS dore-hanire ]amilaani? niD& - weF, biceya, bi?un dunyalalda quwataw muni?& - abun hiqanila qebediCa. - dun bi?ungo quwataw wujarawani, dir TomoFitaRul zalal fonJoCa kwinaanday& - biceya, funJ, dunyalalda bi?ungo quwatab Do muni? Koleb& - an hiqanila wasaS. - dun bi?ungo quwatab bufebani, katiCa dun kunebanday& wasaS katida ve{anila - biceya, dir iciko, hab dunyalalda bi?un quwatab muni? Koleb& - an. - dun Kola, walah! - an a\anila katiCa. - quwatabgi dun, vaqabgi dun, kwas zwaleb harpil mafal fadal, faSiyal cabigi dir, dun Koleb huri-qedgi hezeb, nuVa-Galdugi hezeb, ToraF-raFgi vaq bopuleb, mi]algi purulel diCa. miw! miw! miw! - abun Cebe Zanila ketu.

  • Хӏамаги бацӏги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ХIамаги бацIги Цо нухалълъ бацIида хIама батун буго цо тоххаб бакIалда. БацI бихьарабго, хIама гьагIдон буго, хIокъ-хIокъ абун, чIчӏечIого рачIчI хьвагIезабун буго, гIундул гъуцIизарун руго. БацIицца гьикъанила: – Дун бихьани, дуцца лъабго батIи-батIияб гIамал гьабула, гьелълъие хIисаб щиб, – ан абун. ХIамицца абун буго: – Дун гьагIдола мун хIинкъилародаян, дуда хIал лъазе теларилан абун. РачIчI хьвагIун, хIокъ-хIокъан абула дур рахIму бегьилародаян абун. БацIицца абун буго: – Дун бихьизегIан гьагIдолеб букIана гури мун? – абун. ХIамицца абун буго: – ХIамаги кIертги бачIине кколаан дида асскIобе, гьезда дунго бугеб бакI лъазе гьагIдолеб букIана, – абун. БацI цIакъ разилъанила, лъабабго чIвазе кигIан лълъикIхха букIина абун кканила. КIартил гьанаде алълъул цIакъго гъира кканила. АсскIоб жибгоги чIчӏун, бацIицца хIама жеги-жеги гьагIдезе тIамунила, ххеххго долцоял тIаде щвезе гъираялда. ХIамил бетIергьан вукIанила хIамаги билун, цIакъ ургъалида тирулев. Гьессда хIамил гьагIдей рагIун буго, гьеб рагIараб бакIалде валагьун векерун вуго. БацIги хIамаги кIиябго батун буго. Воххуцца холаго, кьвагьун буго асс туманкI, чIван буго бацI. БацIил цIцӏокоги бахъун, хIамида гьебги лъун, рокъове вилълъанила бетIергьан.

  • Щив бергьарав? | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЩИВ БЕРГЬАРАВ? Цо росулӀ гаргадизе маххщел вугев, цоцалълъ къаццандун вукӀунарев кӀиго чи вукӀанила. Цо нухалълъ цоясс цогидав, гаргадун къезавизе къассдалда, рокъове ахӀанила. ЦӀакъ бухӀараб чурпаги ццебе лъун, кванаян абунила. Босанила гьесс чурпа кӀалдибе, бухӀиялълъул кутакал бадиб магӀуги ккун, мокърукье валагьанила. - Валагьизе щибго гьечӀин, гьаб рукъ росу бахъун бараб бугин, - илан абунила рукъалълъул бетӀергьанасс. - Росу бахъун биххизеги ккаги, - ян абун, гьевги тӀаде вахъанила. ?iw berharaw& co rosu` gargadiRe ma{?el wugew, coca' qaCandun wujunarew jigo xi wujanila. co nuha' coyaS cogidaw, gargadun qeRawiRe qaSdalda, roqowe a\anila. vaq bu\arab xur<agi Cebe ;un, kwanayan abunila. bosanila heS xur<a jaldibe, bu\iya'ul kutakal badib mafugi Kun, moqrupe walahanila. - walahiRe ?ibgo hezin, hab ruq rosu ba]un barab bugin, - ilan abunila ruqa'ul beTerhanaS. - rosu ba]un bi{iRegi Kagi, - yan abun, hewgi Tade wa]anila.

bottom of page