top of page

Результаты поиска

1985 results found with an empty search

  • k | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Р r 1. Рагъ ккараб меххалълъ гуребила ярагъ хIадурулеб, рагъ ккелалдейила. 2. Рагъалдасса рекъел лълъикIаб. 3. Рагъалълъ вас гьавуларо, гьавурав чIван гурони. 4. Рагъалълъ къед баларо, бараб биххун гурони. 5. Рагъда щив бергьаравали, рагъ лIугIидал лъала, чIчIужуялълъ васищ гьавилевали, къинлъидал лъала. 6. Рагъде вахъиналде мунгоги лъай, дурго тушманассул къуватги лъай. 7. Рагъде лIутизе гурелила унел, рагъизейила. КIийидеги рекъав цо рагъухъан рагъде унев вукIанила. Данде ккарасс гьессда абунила, - Ле талихIкъад! ЛIутизе ккани, дуцца щиб гьабилеб? Бищун ццеве ххадув гъурасс чIван реххила гури мун! - Рагъде лIутизе гуро унел, рагъизеги бергьинеги уна! – ян жаваб кьунила рекъав рагъухъанасс. 8. Рагъидаго – бакъ, къотIнобго – мажгит. 9. Рагъулебги гIадат, рекъолебги гIадат. 10. Рагъун рихьунила белехь рекъарал. 11. Рагьуге ракI, рагьани, къаге. 12. РагьумахIугIан бегизе захIматаб мегIер гьечIеб. 13. РагIабаз гуребила калам берцин гьабулеб, магIнаялълъила. 14. РагIал бахъараб, ракьан бахъичIеб каламалдасса цIунаги. 15. РагIал бахъун, хур бекье, ракьан бахъун, бокь хъващтIе. 16. РагIал гьечIеб майдан букIунареб. 17. РагIалалдасса ракьан лълъикIаб. 18. РагIанщинаб бицаравги – гьерссихъан, бихьанщинаб бицаравги – мацIцIихъан. 19. РагIанщинаб бицинги мунагьила. 20. РагIанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб. 21. РагIарав нусго нугIассдасса бихьарав цо нугIго лълъикIавила. 22. РагIаралдасса бихьараб битIараб. 23. РагIи абилалде лъабцIцIул ботIрониб ссверизабейила. 24. РагIи бадибе лълъикIаб, тIил мугъалде лълъикIаб. 25. РагIи бакI бихьунила абизе кколеб. 26. РагIи баччуларесс зар баччулеб. 27. РагIи бице, бакI бихьун, ургъел бикье, чи вихьун. 28. РагIи бице, магIна бугеб, кици тIаме, гогьар бугеб. 29. РагIи бугеб рукъалдасса магIу бугеб рукъго лълъикIаб. 30. РагIи гьабизе – нус, нису кваназе – яс. 31. РагIи гьабуларесс боцIцIи хьихьуларо. 32. РагIи гьечIони, кечI букIунареб, гамачI гьечIони, къед букIунареб. 33. РагIи гьорое биччалев Гьорол МухIума. 34. РагIи гьуинаб бицун, гьоло кунев бетIеркъотI! 35. РагIи гьуинассул гьудул гIемерав, кIал хъачIассул тушман гIемерав. 36. РагIи гIакъил – гIакълугьечI, гьури кIодо – пишагьечI. 37. РагIи гIемерав вакъарав, бугIа гIемерав гIорцIцIарав. 38. РагIи гIемерав «гIакъил» гIадамазда чIалгIуна, чIалгIаде гаргадулев ххалкъалдаго рихуна. 39. РагIи жаниб лъоларессда бицинегIан, квенчIчIел цIун къватIибе байго лълъикIила балъголъиялълъе. 40. РагIи къокъаб лълъикIабила, гIарщ ххалатаб лълъикIабила. 41. РагIи къокъал, къадар ххалатал ратаги. 42. РагIи кьара буго – кьей хIалакъ буго. 43. РагIи кьварараб бице, кьабизе ккани, лIута. 44. РагIи кьогейила, кьуни тIубазабейила. 45. РагIи кьучIчIав чи чодаги лъалев. 46. РагIи лъалев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодов. 47. РагIи лъалев гIабдалассдасса мацIцI лъаларев цIцIодор лълъикIав. 48. РагIи рагIуде бачIуна, гIор кьодукье бачIуна. 49. РагIи – рекIел кIул. 50. РагIи тIагIуна, тIолалго гIадамал хвараб меххалълъ, гIайиб тIагIуна, щивниги тIад кIалъачIого тараб меххалълъ. 51. РагIи ургъун бице, гали борцун тIаме. 52. РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме. 53. РагIи ххалат, ххабар къокъ. 54. РагIи хвани, чи холев. 55. РагIи хварав чи – живго хварав чи. 56. РагIи холев чияссулгун гьудуллъиги гьабуге, холарев реххунги тоге. 57. РагIи-ххочI ххалатассул ххиянат камулареб. 58. РагIи ххалеб хадиро, ххараб цIцIалкIулеб цIцIалкIу (ххараб чIчIикIулеб чIукIна). 59. РагIи хIалакъаб бице, гьан кьарияб кванай. 60. РагIи – ццебессан, тIил – нахъассан. 61. РагIи цIцIалкIулеб цIцIалкIу, цIцIад кколареб буртина. 62. РагIи цIеххоге, хIалтIи цIеххе. 63. РагIи цIцIикIкIиналдасса чIагIа цIцIекIлъиго лълъикIила. 64. РагIи чол багьаяв – живго чахъдал багьаяв. 65. РагIи чIчIедал – гIакъил, кьалда бергьиндал – багьадур. 66. РагIиги кьун, тIубачIого теялдасса, рагIи кьечIого тезе бигьаябила. 67. РагIизе бокьулареб жо рагIулареб. 68. РагIиялълъ гIадан лъала, гIамал бихьун реххссола. 69. РагIуд гIорцIцIиги тIоход вакъиги – цого жо. 70. РагIуд ракъаги, богIод гIорцIцIаги. 71. РагIуда божуге, хIалтIуда божа. 72. РагIуда куркьбал рукIунел (ца таралълъ мегIер толеб). 73. РагIуда ххадуб рагIийила. 74. РагIуда хIатIал гъурай, хIалтIуде нуцIцIа къарай. 75. РагIудаги хIалтIудаги гьоркьоб къол нухила. 76. РагIуе рагIи камулареб, яргъие ярагъ камулареб. 77. РагIукъавщинав гIинкъав вукIунарев. 78. РагIул гугьар гьечIин, гьурал жалго те. 79. РагIул гIомо гьабуге, гIабдалгун щагъадуге. 80. РагIул гIомоялълъул гIарщал гьаруге. 81. РагIул камитал кварасс керен ххачазе ккараб. 82. РагIул квешлъи – ххалалъи, ххарбил квешлъи – гIемерлъи. 83. РагIул кумек боцIцIул кумекалдасса кIудияб. 84. РагIул магIна бичIчIуларесс битIараб гьерессилъун, гьересси битIараблъун гьабулебила. 85. РагIул магIна бичIчIулеб, бакI бихьун. 86. РагIулI лълъикIлъиги букIунебила, гIажалги батулебила. 87. РагIулIе загьру жубаге. 88. РагIухъ ралагьуге, хIалтIухъ ралагье. 89. РагIуцца бахъулареб хъала букIунаребила. 90. РагIуцца гIадан лъала, даруялълъ тоххтир лъала. 91. РагIуцца лIукъулел, рагIуцца сахги гьарулел. 92. РагIуцца рагIи бахъула, чIагIдацца гIуп бахъула. 93. РагIуцца хур беэн гьабуларо, гьури-мучалълъ чIараларо. 94. Радал багIар – къинаб, къасси багIар – хIораб. 95. Радал барщани, къасси рекъолел нилIералго лълъикIила. 96. Радал бицараб къоркъое арай, къасси бицараб борхьие арай. 97. Радал вахъаравги гьитIинго чIчIужу ячаравги нахъа воххулев. 98. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб. Журай къинлъулеб заманалда цо-цо ягъзинав вехьасс, радалго вахъун, жиндирго лемагалда чияр цIцIуяб кьегIер босизабулеб букIун буго, чияралда жиндирго бихьинаб кьегIер босизабулеб букIун буго. Гьединаб хъублъиялда тIад бижараб гьаб кици жакъа хIалтIизабула радал вахъарассул хIалтIи лIугьуна, иш битIун ккола абураб магIнаялда. 99. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб, ццудун вахъарассул сахлъи лълъикIаб. 100. Радал вахъинчIессе къо къваридаб. 101. Радал вахъудасса гIадин къаркъалаги букIунаребила, чи ховудасса гIадин ракIги букIунаребила. 102. Радал вачIарав гьобол ххеххго унев. (Гьаниб гьобол ккола тIабигIат. Умумузул аби буго радал рачIарал накIкIал ххеххго нахъе унилан). 103. Радал кваначIого, къватIивеги вахъунге, къватIул ххарбал росун, рокъовеги вачIунге. 104. Радал къалъизегIан бугони щиб къолол магъало, къалъудасса нахъе бугони щиб росдал кIодолъи. 105. Радал - къалъизегIан къулгъу цIцIалулев, къалъудасса нахъе чагъир гьекъолев. 106. Радал - къалъизегIан къуръан цIцIалулев, къалъудасса нахъе хIамул рикъулев. 107. Радал – къватIиве, къасси – жаниве. 108. Радал – рохьдолIе, къасси – бокьобе. 109. Радал роцIцIун, къалъуда кьерхун. 110. Радал яхъаралълъул балъ тIокIаб. 111. Радалги къассиги квен россассул бугони, къадеквенгIаги чIчIужуялълъулги букIине кколеб. 112. Радалго гьабураб хIалтIи лълъикIаб, гьитIинго ячарай чIчIужу лълъикIай. 113. Радалисса мацIцIицца чанги чи мукIурлъулев, мацIцIида ракI рекъарав бакъ ун ххадусса лъалев. 114. Радалквен дуццаго кванай, къадеквен гьалмагъгун цадахъ кванай, къассиквен тушманассе кье. 115. Ражи мискинчияссул дандежойила. 116. Ражи тIагIиндал тIураб цIцIамулIин гIадав. – Ражи хху - ххун, ххинкIал квин дуццаги те, Ххарабат! – ХхинкIазда гIужал райи дуцаги те, хIалихьат! 117. Ражи цIцIоролеб моцIцIалълъ ЦIцIолода рохьовеги унге, цIцIани къинлъулI мундерил ахакьеги унге. 118. РажидулI анкьго дару букIунеб. 119. Разилъи гьечIого яс ригьнаде кьейги кIудияб мунагьила. 120. Разияб къоялълъ гIурусазул гьатIанкъо гIадав, пашманаб къоялълъ жугьутIазул шаматкъо гIадав (ВитIани – гьатIан, гьетIани – шамат). 121. Рак бараб хуриве Аллагь валагьунев, бечедаб рокъое яс ялагьулей. 122. Рак баралълъуб хIалухъин хIалигIараб букIуна. 123. Рак гьечIого, бокь бичуге, бекьичIого хур бичуге. 124. Рак хIаллъанагIан, хIалухъин гьарзалъулеб, кици гIемерлъанагIан, калам берцинлъулеб. 125. Рак чIвачIеб хуралдассаги цIунагийила, хур гьечIеб рукъалдассаги цIунагийила. 126. Рак чIвачIони, ракьалълъ пайда кьолареб, хъулухъ гьабичIони, ахикь пихъ бижулареб. 127. Раква гьетIунилан, гьобо хисулареб, гьобо бекунилан, раква хисулареб. 128. РакугохI хисунилан хъабхъал чIахIалъиларо. 129. Ракъдадаги вукIун гуребила ччугIа кколеб. 130. Ракъдада лIугьараб хIор ххеххгого къунебила. 131. Ракъи – хьул, кIвахI – ссвак. 132. Ракъугеги, гIорцIцIугеги, рахакь хваги. ПатихIа. 133. Ракъуда нич гьечIеб, бечелъиялълъе гIей гьечIеб. 134. Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани, рагIи гьуинлъула. 135. Ракъул къали кIутIугеги, къохьол тIажу ретIунгеги, чиякълъун чи ххутIугеги. 136. Ракъусоналълъ месед учузаб. 137. Ракъусоналълъ руцIцIун чIчIарал, гIорцIцIунсоналълъ релъанхъарал магIарулал. Ракъусоналълъ, хъабиниб бетIерги къан, годекIаниссан унеб гьойда щивго велъичIевила. Хур бачIараб соналълъ, гьебги ракIалде щун, киналго релъаралила. 138. Ракъусоналълъ эбел якъуцца хварайила, вас, чохьодасса ун, хваравила. 139. Ракь бижилалде, рак бижарабила, гIолохъанчи вижилалде, гьекъолеб жо бижарабила. 140. Ракь бухъани, месед батулебила, рагIи бухъани, гIажал батулебила. ВукIун вуго цо бечедав чи. БукIун буго гьессул кIудияб ахги гIатIидаб пастIан-къоноги. Кидаго гьесс кIиявго васассда абулеб букIун буго - “РакьулI месед бугебхха, дир лъимал, рагIулI гIажал бугеб. Ворехха, нужецца ракь гIемер бухъе, рагIи дагьабги бухъуге!” – ян. Жинцца ракьулI баххчараб щибниги жо гьечIого, инссуцца кидаго нилIеда гьадал рагIаби гIемер абилароанилан ракIалдеги ккун, кIиявго ваццасс ракь гIемер бухъулеб букIун буго. Месед-гIарац жинда-жинда батилародаян, цоцаздасса балъгоги хъирщадулел рукIун руго. КъотIун буго пайдаяб жо батиялдасса хьул. Реххун тун буго ваццаз ракь, ракьалълъ гьалги тун руго. Заманалдассан гьитIинав ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги кIудияв ваццассул хIелеко хъазлъун бихьун буго. КIудияв ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги ккун буго гъозул хъаз варанийилан. КIудияссухъе щун батилин дагьабниги меседилан гьитIинав, гьитIинаб гIонкIкIоцца гуккун ватилин живилан кIудияв, цоцаздеги шакдарун, рагIи бухъизе лIугьун руго. Руччабазги риччан руго рагIул ххалатал раххссал. Инссуцца меседилан ссунде абулеб букIарабали бичIчIичIел лъималазда рагIулI гIажал цIакъго кIудияб батун буго. 141. Ракь кинаб букIаниги, гьелълъ гурони нилI хьихьуларел. 142. Ракьа гьечIеб гьан букIунареб. 143. Ракьа гьечIеб гьанги хIе гьечIеб гьоцIцIоги букIунареб. 144. Ракьалда бихьичIониги, хIарам зобалда бихьулеб. 145. Ракьалдасса бер гIорцIцIулареб, гIарац тIассан чваххулареб. 146. Ракь-ракьалълъул гIадат батIияб, гIадамазул ххассиятги батIияб. 147. Ракьа бугони, гьан камиларо. 148. Ракьа бугониги гIолебила ГIандисса чое. 149. Ракьалдассан рижарал нилI ракьалде тIад руссуна. 150. Ракьалда тIадалдасса ххиянатчияссе ракьул чохьонибго лълъикIила. 151. Ракьул бетIергьан вуго ракь хIалтIизабурав чи. 152. Ракьул гIанкIкI ракьул гьойцца гурони кколареб. 153. РакьулI баххчаниги балагьулебила гьунаралълъ къватIибе нух. 154. РакьулIе ккараб мугь тIирщичIого ххутIулареб. 155. РакьулIе регьел – ракьулIан тIорщел. 156. РакьулIе рехханиги, месед холареб, хабалIе аниги, бахIарчи холарев. 157. Ракьуцца кваназавизе бокьарасс ракьги кваназабе. 158. РакI бахIарлъунилан, черхх цIилъуларо, Чорххол лугбузул гьан гур-гурун ххадуб, Горбол щекI цIцIабуцIцIун, мугъ битIуларо, Мугъзал гьод къулараб къо бачIун ххадуб. 159. РакI бащалъуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, чехь бащалъуларессулгун гьалмагълъиги гьабуге. 160. РакI бакъвани – Закил рукъ, ццим бахъани – Ххизрил рукъ. 161. РакI бащалъун квараб гурга лълъикIабила, мекъсса руссун квараб чадидасса. 162. РакI беццлъиялдасса бер беццлъи лълъикIаб. 163. РакI бечедассул рукъ мискинаб. 164. РакI битIизегIан, мацIцI битIулареб. 165. РакI бихьуларев гьудулассдасса берал рихьулев тущман лълъикIав. 166. РакI гурхIун, асскIобе бачараб бурутI, ццим бахъун, бачахъизе ккарабила. 167. РакI гIедегIарассе нух ххалатаб. 168. РакI квегъиялдасса черхх квегъи бигьаябила. 169. РакI къварилъи – херлъиялълъул бащалъи. 170. РакI кьерхарассе дунялги кьерлъун букIунеб. 171. РакI рагьуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, сапар хIехьолареб хIамагун нухдаги унге. 172. РакI херлъичIогойилан, къаркъала херлъичIого букIунареб. 173. РакI унтун гIодани, беццаб бадиссаги магIу баккулеб. 174. РакI херлъугеги, хоб билугеги. 175. РакI чIчIараб жо – гIайлан чед. 176. РакI щваралълъубе хIетIги щун. 177. РакI щулияссул черххги щулияб, ракI тамахассул черххги тамахаб. 178. РакIал гIатIидалълъуб бакIги гIатIидаб. 179. РакIалда бугеб жо бицинчIогойила нухъа чIчIегIерлъараб. 180. РакIалда бугебщинаб гьурщизе кколареб. 181. РакIалда гьечIеб мугъалда нахъа батугеги. 182. РакIалда къараб къватIибе реххичIого ххутIулареб. 183. РакIалдасса ххеххаб жоги гьечIеб, ххеххго хисулеб жоги гьечIеб. 184. РакIалълъ борце, гIакълуялълъ къотIе. 185. РакIалълъ пикру гьабичIони, канал бераздаги щибниги бихьулареб. 186. РакIалълъ хвел гьарулей, кIалалълъ сахлъи гьарулей. 187. РакIа-рахари гьечIезул къо, къваригIараб жо балагьулаго, унебила. 188. Ралъад гъваридабгIаги, гьелълъулги тIину бугеб, мегIер борххатабгIаги, гьелълъулги бетIер бугеб. 189. Ралъад лълъецца гIорцIцIулареб, боцIцIи гIун, чи холарев. 190. Ралъдадаги гел лъе, гIемер бугилан исрап гьабуге. 191. Ралъдаеги щуб къваригIунеб, щубаеги бакъ къваригIунеб (Ралъдаеги – щуб, щубаеги – бакъ). 192. Ралъдал карачелалда рекIинчIони, гьоцIцIо щоларо. 193. Ралъдал лълъималълъеги пасалъи бегьуларебила. 194. Ралъдал лълъим цIцIикIкIуна тIаде рачIунел гIораздалъун, тIадчияссул лъай цIцIикIкIуна чияцца бицунелълъухъ гIинтIамиялдалъун. 195. Ралъдал тIину гьечIеб, гIорцIмадул тIинчI гьечIеб. 196. РалъдалIе бохх биччан паххрулъарай мун, Ралъад къундай бугеб, мун къулун йигин. Меседил мали чIван зодой яхарай, Молол гIучI бекундай, гIодой чIван йигин. 197. РалъдалIе лълъимги баччуге, рохьобе тIилги босуге. 198. РалъдалIе реххараб рукIкIада ххадувги унге, хварав чияссде гIайибги реххуге. 199. Рас бижанагIанила гIункIкI бугьунеб, бечелъанагIанила чи бараххщулев. 200. Рас ххалалъунилан хханасс мун ячинаро. 201. Рас хIеренаб бихьунила хIанчIицца руз бетIулеб. 202. РатIа – биххаро, бохх – гIуцIцIаро. 203. Рател гьечIеб хIалтIи – меххтулареб чIагIа. 204. РатIалги щоларого, щигатги гIоларого. 205. РатIаялълъ гьоркьоблъи тIезабулеб, боххалълъ гIуцIцIулеб. 206. РатIлид вуцIцIарассул хIурмат кIудияб, тIагъур хIуларассухъ гIин тIамулареб. 207. РатIлие эххетарав тIоххое бегьуларев. 208. РатIлил исбагьилъи – гьарзалъи, чорххол исбагьилъи - ххалалъи. 209. РатIлихъ балагьун – дандчIвай, ххарбихъ балагьун – тIовитIи. 210. РатIлицца чийилан, чухъа ретIарав, чоцца багьадуран, ябу рекIарав. 211. РатIлицца – чи, чоцца – багьадур. 212. Рахакь хIебтIарав хIал ккедал къватIив чIвалев. 213. Рахал рикIкIунев гьечIев чиясс квеш вугилан абуге. 214. Рахараб гъамассги буцIцIараб кIалги – кIиябго бечедаб жо. 215. Рахен гьечIеб гIор букIунареб, нух гьечIеб мегIер букIунареб. 216. Рахен гьечIеб кьуру гьечIеб, рагIал гьечIеб авлахъ гьечIеб. 217. РахъдалI бугониги, чиниги лъала, чурулI бугониги, меседги лъала. 218. Рахь баккулареб гIакдае чури кьоге. 219. Рахь гьечIеб гIакдацца гIартилI мал бала. 220. Рахь гIемер унеб бугилан, гIункIкI къан цIцIурай, гIадада жо теларилан, хвараб гIака бечIчIарай. 221. Рахь кьолареб гIакдае чури кьоге, пайда бахунареб жоялълъе ххарж гьабуге. 222. Рахь хахулелълъул бече хIалакъаб. 223. РахьдалI рас ххеххго бихьулеб. 224. Рахь-нах бокьарасс гIака лълъикI хьихье (ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран). 225. РахIат гьечIеб хIалтIудассаги цIунаги, хIалтIи гьечIеб рахIаталдассаги цIунаги. – РахIат, хIажи, рахIат! – ан абурабила гIарабиясс варани цогидазулалда ххадуб гъезабеян абурав хIеж борххулев магIарулассда. РахIат букIуна дие, дир вараниялълъул бетIер цогидазулалда бащалъараб меххалълъ! – ан жаваб кьурабила магIарулассги. РахIатаб гIумру бокьани, дуццаго чияеги гьабуге налъи, чияда дуегоги гьабуге. РахIатал гьарзалъани, гIакълу гьечIев чIухIула, Балагьал тIаде щвани, ххеххгого къварилъула. 226. РахIаталълъе гIей гьечIеб, рокьуе гIурхъи гьечIеб. 227. РахIаталълъе гIей гьечIебила, боцIцIи гIун, гIаданги хвечIевила. 228. РахIаталълъе гIей гьечIилан, ГIакулицца бусен борлIарабила. 229. РахIатгун – хIалихьалъи, захIматгун – бахIарчилъи. 230. РацIцIалъи гьабулей гурейила яцIцIадай, рацIцIалъи цIунулейила. 231. РацIцIалъи – сахлъиялълъул бетIер, чороклъи – унтул гьудул. 232. РацIцIа-ракъалъи гьабизеялдасса цIунизе лъазе ккола. 233. РацIцIа-ракъалъи гьабулелълъуб гуребила букIунеб, цIунулелълъубила. 234. Рачараз лълъудби хьихьаги, гьарураз лъимал хьихьаги. 235. Рачелалълъ чехь къарав, чоцца гьан къарав. 236. Рачиде баче чаран. 237. Рач-рачаги, а-аги, ирга дидеги щваги. 238. Раччлиде гIи аралълъуссан хIатIида гIицIцIго ине ккаги. 239. Раччи бачче черххалда рекъараб, квен кванай чехьалда рекъараб. 240. РаччулI хIама къинлъугеги, хIалтIулI лълъади къинлъугеги. 241. РачIчI бухьун, хIама чIчIолареб (ХIамил рачIчI бухьун чIчIолареб). 242. РачIчI къотIун, борохь къелIе биччаге. 243. РачIчI кIудияб лIугьинейилан, дегIен хьихьун букIарабила, лIурдул кIудиял лIугьун, чехь бихъизе ккарабила. 244. РачIчI ххалатаб гьойги хьихьуге, гьод ххалатаб чуги босуге. 245. РачIчIалдасса чIухIараб хIелеко гIадин. 246. РачIен гьечIеб рукъ – охх унеб гьобо. 247. Ращалъи гьабунагIан, гьуинлъи (гьудуллъи) цIцIикIкIунеб. 248. Ращалъиялълъул асслу – ритIухълъи. 249. Регьел гIуралълъубе щуб гIолеб. 250. Регьел хIалалъуб чед кIудияб, чи хIалалълъуб хIалтIи кIудияб. 251. Регьелги ххинлъиги гIедалила гIодобе бортараб мугь тIирщалеб. 252. РегIараб меххалълъ гуребила кумек гьабулеб, къваригIараб меххалълъила. 253. РегIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге, херлъараб меххалълъ гьабилилан динги тоге. 254. РегIараб меххалълъ гьабилилан кумекги тоге, щвараб меххалълъ бецIилилан налъиги тоге. 255. «РегIуларо», «щоларо» гIилалъун рикIкIунаро. 256. РегIун гIумру аги, хIехьезе гIакълу кьеги. 257. Рекъав чияссул рагIад къокъаб букIуна. 258. Рекъараб гIамал ккурав гIадамазе вокьула. 259. Рекъараб рехъалълъ хъумур речIчIулареб. 260. Рекъасс къвал цIурабила, къокъасс магь баччарабила. 261. Рекъел бугила масслихIатчагIазул иш, цин ХIаригабурлъи бегейила. Яс уней йиго васассда ххадуй лIутун. Гьезие хIинкъи буго ахIуд бахъун бачIараб ясалълъул гIагарлъиялълъ жал чIваялълъул. Ясалълъ васассда абулеб буго, унго, умумул нилIеда тIассагIаги лIугьинародай, гьел нилIгун рекъезарулев чиго вукIинародайилан. Васасс ясалда абун буго, цин хIинкъи бугеб бакIалдасса рорчIилин, маслихIаталълъе чи камиларев ватилилан. Кициялълъул магIна буго - «Цин хIинкъиялдасса цIуне, ххадуссеб ххадуб гьабе», – ян абураб. 262. РекъечIеб бицарассда бокьулареб рагIулеб, ххвалчадул ругънадасса рагIул ругъун унтулеб. 263. РекъечIелълъуб кIал гъурай, кIваричIелълъуб бер гъурай. 264. Рекъолареб ганчIицца къед ссурукъ гьабула. 265. Рекъон кванай, къецц бан хIалтIе. 266. Рекъон хIалтIаразул хIалтIи гIемераб, рекъон ахIаразул бакъан рекъараб. 267. Рекъон чIчIикIаре. Жибго гьитIинаб «гIамал кIудияб» кIиго рагIиялдассан гIуцIцIараб гьаб кициялълъул гьайбатлъиги берцинлъиги! Вихьизе гьитIинав, гьунар кIудияв чияссде магIарулаз абула тIаде вугевгIанассев ракьулIеги вугев чийилан. НилI жиндасса чIухIизе бегьулеб гьаб кIиго рагIиялълъул кьалбал гъваридал руго. Гьалълъ бицуна цолъиялълъулI гуч букIиналълъулги, росдал газа кьурда рекIиналълъулги, кIиго бетIерги рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ бечелъиялълъул, инсаният рекъон хIалтIанагIан, кинабго рахъ ццебетIеялълъулги, бищунго инсанассе хIажатаб, рекIее рахIат бугеб, хIинкъи гьечIеб гIумруялълъулги. Гьелда тIад бижана - «Рекъон хIалтIанагIан цадахъаб магIишат бечедаб», – ан абураб цIияб кициги. 268. РекIараб чуялда кьурдарав дун, кьолочIеб гIорцIмада рекIарав мун. 269. РекIаралълъув рещтIаги, борчаралълъуб бичаги. 270. РекIарассда лъелав велъуларев. 271. РекIаразул бода гьабизе кIолареб гIакъилассул кIалалда гьабизе кIолеб. 272. РекIарассухъ ралагьун, рекIа, рещтIарассухъ ралагьун, рещтIа. 273. РекIеда балареб гьуриялдасса гьури-бакъ чIвалареб чIчIегIер ракьулI лълъикI! 274. РекIеда бараб хIапаро гIадав чи. 275. РекIеда кIулал рарав, кIалдиб килас кьабурав. 276. РекIеда тIатIи рекIарав мун, тIулида нацIцI барав дун. 277. РекIеда тIатIи рекIарав хIариколоссессда хIатIикь цIа бакарав кIахъияв вичIчIиларо. 278. РекIедасса рекIеде – кьо. 279. РекIее бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколев. 280. РекIее бокьараб жо – чорххое мархIам. 281. РекIел бер балагьичIони, бералда канлъи бихьулареб. 282. РекIел бечелъиялда боцIцIул бечелъи бащалъуларебила. 283. РекIел гIадлу биххугеги, чорххол гIамал хисугеги. 284. РекIел гIин гIенеккичIони, гIиналда рагIи рагIулареб. 285. РекIел къварилъиялълъ гьакълиде цIцIалел, дагIба-къеццалълъ кьалде ахIулел. 286. РекIел пашманлъи хъамулеб гьури – хIалтIи. 287. РекIел хIуби – чехь, чохьол хIуби – чед. 288. РекIелI бугеб лъалареб, лъороб бугеб бихьулареб. 289. РекIелI бугеб меххалълъ нилI балъголъиялълъул хханзабийила, цабзаздасса борчIани, нилI гьелълъул лагъзалила. 290. РекIелI бугеб хъублъи гьурмадаги бихьулебила. 291. РекIелI цоги ккун, кIалалълъ батIияб бицунге. 292. РекIелI цIунараб цо хIарп лълъикIабила кагътида цIунараб нусго рагIиялдасса. 293. РекIелI чаран бугессе чинаридул тIилги тIассан ккараб ярагъила. 294. РекIелIа рокьи кIалдисса гIус гIадин бахъуларо. 295. РекIелIан бачIараб рагIи гурони, рекIелIе унареб. 296. РекIиндал Аллагь кIочон тарав, рещтIиндал чу кIочон тарав. 297. РекIиндал чу лъалеб, вилълъиндал рекъав лъалев. 298. РекIине лъараб гIадин, рекIараб чол квелълъ кквезеги лъа. 299. РекIинеги лъа, рещтIинеги лъа. 300. РекIинчIого чу лъалареб, чиякълъичIого чи лъаларев. 301. РекIун бихьун, чу босе, лъун бихьун, кьили босе. 302. РелъанагIан гIодизе кколел. 303. Релъедал макьилI щиб бихьулареб, вокьуларев чиясс щиб бицунареб? 304. Релъи букIунебила бачIарабги бачIине гьабурабги. 305. Релъи гIемералълъуб талихI гIемераб. 306. Релълъаразда релълъаралила росс-лълъади данде чIвалел. 307. Релълъаралда релълъарабила ратIлида рукъи балеб. 308. Релълъаралда релълъарабила рохьдолI хIайванги данделъулеб. 309. «Рес бугезул гъáлалълъ», – ан гьагай бикаялълъ месед гъалазда гьоркьоб хьухьун букIарабила. 310. Рес гьечIеб сон - савуд бухIараб дуниял. 311. Рес къотIидал вагъуларев чи вукIунарев, ручнибе тIамидал багъулареб гьой букIунареб. 312. Рес къотIидал хIинкъаравги къвакIулев. 313. Рес мекъаб гъветI камураб рохь букIунареб, гIабдал камураб росу букIунареб. 314. Рес рекъаравгIан чи – къарумав, мискинавгIан чи – саххаватав. 315. Рес щибила Чакарил, мочол хурий ятидал. 316. Ресги бугони, резги бугони, хъарбекIалда горал тIамизе бигьаяб жойила. 317. РетIел инжит гьабуни, ратIликълъиги бихьулеб, чед инжит гьабуни, чадикълъиги бихьулеб. 318. РетIел къадараб букIа абе, къамартIго чIчIа, мискинчи. 319. РетIел бихьун, къабул гьарулел, гIакълу бихьун, тIоритIулел. 320. РетIел бихьун – чи, чу бихьун – бахIарчи. 321. РетIел тIутIурассде гьабиги рортулел, тIагъур хIуларассда тIохIокги велъулев. 322. РетIел ххашав чияссде ххеххго рагIи реххуге, хъабчилI багьадур ватун, рекIекълизе бегьула. 323. РетIел цIидалъго цIуне, намус гьитIинго цIуне. 324. РетIел цIияб лълъикIаб, гьудул басрияв лълъикIав. 325. РетIине гурони къоги бачIинчIо, къойил ретIун хвараб дарайдул гурде! 326. РетIине камугеги, кваназе тIагIунгеги. 327. РетIине лъаларессе читери кьурав Аллагь, Чуризе лъаларессе мандари кьурав Аллагь. 328. Рехханщинаб чIор гIужда щолареб. 329. Реххаралълъуб тIенкел, тIамуралълъуб турут гIадин. 330. Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб бечелъи. Ххунздерил хханассулги гьидалъессулги бечелъи сабаблъун дагIба-къецц кканила. Жив бечедав вугилан ххан, гурила, жив бечедав вугилан гьидалIев чIчIанила. АхIанила хханасс гьидалIев Ххунзахъе, бихьанила гьессда жиндирго бугебщинаб гIарац-меседги гIарац-меседалълъул гьабураб къайиги. Жойидего гьабичIила гьидалIес гьеб бечелъи. Анила ххан ГьидалIе гьидалIессулги бечелъи бихьизе. ЦохIого цо цагъурги ссанкIалги цIураб ролI бугила гьессул, я гIарац гурила, я месед гурила. ГьидалIессул бечелъиялде бер-ракIго щвечIого, нахъ вуссанила ххунздерил хханги. Анила цо сон, анила кIиго сон, бачIанила Ххунзахъ тIалъиялдаго цIакъ хурукъаб сон. Хханасс, месед-гIарацги босун, гьакалги рачун, жиндирго гIадамал ритIанила ГьидалIе, ролI босизе. ГьидалIес, щибго жоги абичIого, хханассул месед-гIарац чури тIолеб росонибе банила, тIаде гьойги биччанила. Гьелълъ, чуриги чIчIикIун, месед-гIарац, цо мискъал камичIого, росол тIиналда ххутIанила. «Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб нужерго месед-гIарац нахъе босе», – ян абунила гьидалIесс. РачIарал гьакал цIун, ролIги битIанила ххунздерил хханассе. Гьанже бичIчIанила хханассда гьидалIесс живго щай бечедавлъун рикIкIуневали. 331. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила Мала Нассрудиницца, вараниялда куркьбал рижун ратичIелълъул. 332. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила хIамицца, чIчIужугIаданлъун бижун батичIелълъул. 333. Рецц бокьуларев ххан вукIунаревила, ххарж бокьуларев нукар вукIунаревила. 334. Рецц бокьуларев чи къанагIатав, ришват босуларев хIаким дагьав. 335. Рецц гьабун гаргадиялълъ бецц гьарула, гIунгутIаби рициналълъ кантIизарула. 336. Реццалълъ бецц гьавизе вукIунгейила. 337. Реццалълъ гуревила чи гьавулев. Иццухъ дандчIванила лъабго чIчIужугIадан. ТIоццеессей лIугьанила хIаталдасса ун жиндирго вас веццизе. “Дир гIадав малълъарабги гьабулев, гьикъарабги бицунев вас росулIго гьечIо. Лълъицца киве витIаниги, инкар гьабичIого, уна, щиб тIад къаниги, тIубазабула”, – ян абунила гьелълъ. КIиабилелълъги байбихьанила жиндирго вас веццизе. “Валагь, дирги вуго цIакъав вас. ЧIахIиязул адабги гьабула гьесс, гIиссиназул хъатирги гьабула. Цо лълъиениги кумек гьабизе щвани, тIокIаб щибниги къваригIунаро дир дарманассе. Щиб гьабизе дун лIугьаниги, ццеве-ццеве кIанцIун, гьабула”, – ян бицанила гьелълъги. Лъабабилей, гьезухъги гIенеккун, юцIцIун чIчIанила. Гьеб кинабго рагIанила цо херассда. Гьессда ракIалде кканила гьей лъабабилей гIаданалълъул лъимерго батиларилан. Батаниги, гьеб батилин кIкIвахIалаб, хIалтIи рихараб, эбел-инссул адаб гьечIеб рижи. Руччабаз гIертIалги хъубиги лълъел цIунила. Цинги, гъажалда гIертIалги ран, кодор хъубиги ккун, годекIан къотIун, унел рукIанила. Гьенив ганчIида гIодов чIчIун вукIарав цо гьитIинав вас дой щибго жо абичIей гIаданалда асскIове векерун анила. “Дихъе кье, баба”, – янги абун, гьелълъухъа хъаба босанила. Реццарулел рукIарал руччабазул добго ганчIида гIодор чIчIун рукIарал лъималин абуни тIадецин рахъинчIила. Гьеб кинабго бихьарав херасс, бетIерги кIибикIун, абунила - “Реццалълъ гIадан гьавуларо, гIамалалълъ гурони”. 338. РечIчIани, къелIе унев, къани, хIоболIе унев. 339. РечIчIулев-речIчIулев вукIа, цояб щвечIони, цогияб щолеб. 340. Рещалъараб меххалълъ моцIцI тIасса бекула, барщараб меххалълъ бетIичIеб пихъ бортула. 341. РещтIине лъаларев рекIинавуге. 342. РещтIине чIеп гуреб, чIчIезе мокъ гуреб, билълъая, бачинин мунго бичизе. 343. Ригь чIухIарав гуревила бечедав, хур чIухIаравила. 344. Ригьда рега, ригьда рахъа, рузил гIамал жибго те. 345. Ригьин гуро бацIилги гьойдулги гIадаб рекъел, гьудуллъи гуро царалги нухлулассулги гIадаб божилъи. 346. Ригьин – реццалълъул, даран – рекIкIалълъул. 347. Ригьин чияргун лълъикIаб, чи нилIерго лълъикIав (ригьин чияргун гьабе, чи нилIерго ккве). 348. Ригьинги ригьги ургъун гьабе. 349. Ригьнадасса воххарав кидаго берталълъ вуго, ригьин-цIа бигъаразе даимаб гIазаб буго. 350. Ригьнисса гьурал унеб, гьоросса гурцIал унеб (ххасел бащалъиялълъул гIаламатал). 351. Риди гьаризе унесс хъаба баххчулеб. 352. Риди дарулъи лъалебани, нахъияссе щвелароанила. 353. Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман. 354. Рии аги, бугIа гIезе, ххасел аги, рагIи гIезе. 355. Рии кьарияб, кьин хIалакъаб. 356. Рии кьижун арассе ихдал мискинлъиялълъ макьу толареб. 357. Рии нахулаб бачIаги, ххасел бечедаб бачIаги. 358. Рии чIчIедал, хур бекьарав, ххасел чIчIедал, ххер бецарав. 359. Риида – тIингъилI, ххасало – чухъилI. 360. Риидал бакънал рачуней йикIарай ххасало кьурдулей йикIа. 361. Риидал бакъуд мугъ бухIичIони, ххасало чIагIдад чехь бухIуларо. 362. Риидал борохь бихьарав ххасало гIарщикьа хIинкъулевила. 363. Риидал гьарурал ганчIал кьеян абулебила ххасало гIачияз. 364. Риидал гьекичIони, ххасало гьунщуларел. 365. Риидал гIадалнах гьаличIони, ххасало хьаг гьалуларо. 366. Риидал гIодобе бегьараб квер чIобого бачIунареб. 367. Риидал гьабичIеб ххасало батулареб. 368. Риидал жиндие гIоло чIваян абулебила чоцца тIукъби, ххасало нужеего гIоло чIвайила. 369. Риидал кьижани, кьиндал гIака холеб. 370. Риидал кьижарай Кьара ГIашура, Кьиндал гIака холеб рагIичIищ дуда? 371. Риидал риди гьекъе, ххасало нах кванай. 372. Риидал тIимугъ босе, ххасало буртина босе. 373. Риидал – Ххалунчакар, ххасало – Гвангвачакар. 374. Риидал херабги босуге, ххасало хIалакъабги босуге. 375. Риидал хур бекье, ххасало кор баке. 376. Риидал хурив хва, ххасало рокъов хва. 377. Риидал хIалтIарав кьиндал кванала. 378. Риидал черхх берцин гьабула узданаб ретIелалълъ, ххасало – ххинаб ретIелалълъ. 379. Риидал чIарадичIони, ххасало гьороб жо букIунареб. 380. Риидала – Ххассбика, ххасало – къватIулбика. 381. Риидалил цого хур, ххасало гIазукь къараб, Ххасалил цого ссугъур, боххиссан ххер баккараб. 382. Рии-риидал – чIор-чIорол, ххаса-ххасало – гуд-гудучI. 383. Рикьи балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе къали чIехьолареб). 384. Рикьул гьарурал ххинкIал ригьда кунев алазан. 385. РикIкIада бугеб гIагарлъиялдасса асскIов вугев мадугьалго лълъикIила. 386. РикIкIада месед бугилан рагIани, асскIоре щвейдал пахь батулеб. 387. РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула, хун рагIилалде, рукъун ратула. 388. РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардасса квараб ссахI лълъикIаб. 389. РикIкIадассан йихьизе лълъикIай чияр яс асскIоре щун йихьизе жо гурей жо ятула. НекIо гIемериссел магIарул росабалI гIадат букIана абурай яс жиндирго абурассда йихьизе чIчIолареб. Тоххлъукье данде чIван, вас кIалъаниги, яс кIалъалароан. Чанги ячунаан бер чIван йихьичIейги. Гьелълъул хIассилалда гьадаб кициялълъ бицунеб жоги гIемер кколаан. РикIкIадассан гурони чияда рихьуларел бечедал чагIазул жанир тун цIунарал цо-цо ясал канлъукъал, рагIукъал ратулаан. 390. РикIкIаде боржараб гIумру къокъаб цIцIум. 391. РитIухълъи ххвалчадассаги рекIараб. 392. РитIухълъи цIунизелъун рухIалдаги бараххщуге. 393. РитIаралщинал рагIаби берцинал рукIунарел, берциналщинал рагIаби гьерессиялги рукIунарел. 394. РитIухълъи гъоркье, тIекълъи тIаде ккараб заманги букIунебила (Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман). 395. РитIухълъиялде нух ххалатаб. 396. РитIухълъиялълъе диван хIажалъуларо. 397. РитIухълъиялълъул нух гIатIидаб. 398. Рихараб ххоххоцца ххер гIемер кваналеб. 399. Рихханжоялълъул жо гIолареб, гургил чед лIугьунареб. 400. «Рихьдае Бичассул чагIилъун хIараз, Сунатабги гьабун, гьоркьоб тола парз». 401. Риццатазе – тIорахь, тIереназе – риди. 402. РицIцIил тIилада тIорччол бер гъурав вугониги, чоххтIо-чIинчIуялдаса къадараб тIагъур букIунареб. 403. Ришват босуларев хIаким дагьав, хIарам гьабуларев даранчи дагьав. 404. Рододасса нах буххарав, хвараб хIамидасса тIукъби рахъарав. 405. Рокъоб бугеб – къватIул лълъим, кватIиб бугеб – гьацIцIул лълъим. 406. Рокъоб гамачI къулчIчIизе кканиги, къватIиб лъазе тогейила. 407. Рокъоб гьой – къватIибги гьой, рокъоб бацI – къватIибги бацI. 408. Рокъоб как баларев Гогол ГIалицца, гамаялде вахун, жамагIат бана. Кицилъун лIугьарал гьал рагIабаз бицунеб буго ххалкъалда гьоркьор рукIарал жидеццаго какцин баларел, жамагIаталълъе динияб ццебехъанлъи гьабулел рукIарал гIадамазул. 409. Рокъоб къадру гьечIессул къватIибги букIунареб. 410. Рокъоб къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб. 411. Рокъоб къир-къир бугони, дуниял къварилъула. 412. Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIасселълъ. 413. Рокъоб ххам бугони, ххалатаб гурде, ххараб жо бугони, чIахIиял ххинкIал. 414. Рокъоб чед бугессда чияр мацIцI лъаларо. 415. Рокъобго къулгIаги тун, къватIисса лълъим баччарай. 416. Рокъобе нух кидаго гIагараб. 417. Рокъов вукIун, хур босулеб, хурив вукIун, рукъ босулареб (хIажатаб ццебе босе, цогидаб ххадуб босе). 418. Рокъов гъалбацI – къватIив гIанкIкI. 419. Рокъов – дегIен, къватIив - цIцIе. 420. Рокъов цIцIогьор хваги, ЦIцIоров дибир хваги. 421. Рокъой йигеб меххалълъ инссул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ. Кициялълъ бицунеб буго, россассе кьурай яс тIад юссун ячIараб меххалълъ, гьелълъул къадру холилан, хъизаналълъе гьей йокьуларилан. 422. Рокъой йигей лълъадул «лълъикIлъи» батила, лълъимцин хъван гьечIо дур шарбалалда. 423. Рокъой лълъади йокьун, къватIий дун йокьун, Къвалакь гьудул йокьун, берал дий къвакун. 424. Рокъой чIчIужу – бакъги моцIцIги. 425. Рокьаразул такъсир – гьитIинаб мунагь, рихаразул ххатIа – кIудияб мунагь. 426. Рокьи басандичIони, хIалтIул хIур бахъунареб. 427. Рокьи бергьараб жо ккола, эбел-эменни рази гьариги инсанассул борч ккола. 428. Рокьи бикъарав цIцIогьор кколаро. 429. Рокьи бищунго ццидалаб цидулги кколебила. 430. Рокьи гьабизеги вас къваригIунев, Ярагъги борчарав, чуги рекIарав. Балай гьабизеги яс къваригIуней, ГIалххул чундузда гъорлI ритIучI гIадинай. 431. Рокьи гьечIеб черхх – чед гьечIеб таргьа. 432. Рокьи гьечIеб рекIелI ццин букIунаро. 433. Рокьи ккани, кочIохъан яхъуна, чехь бухIани, магIихъан яхъуна. 434. Рокьи ккаразе бусен носол балалдаги гIолебила. 435. Рокьи ккаразе нохъоги – кIалгIа. 436. Рокьи ккарай яс кьералълъ бицуна. 437. Рокьи ккечIей гIаданалда, росода нахъа чIчIун, квен гьабизе лъаларебила. 438. Рокьи ккечIого гьабураб ригьин – гьодораб. 439. Рокьи кьерилI букIунеб. 440. Рокьи, кьолбода гьикъун, гьабулареб, кьал, годекIаниб гьурщун, гьабулареб. 441. Рокьи лълъилго кколеб – рокьуе къвал къазе чи къваригIунев. Балай лълъилго бергьунеб – балай хIехьезеги вас къваригIунев. 442. Рокьи хIарамаб гьечIо, цохIоялълъухъ бугони. Гьекъел хIарамаб гьечIо, гьекъезе лъан, гьекъани. 443. Рокьи – цо, рещтIунеб бакI – кIиго. 444. Рокьиялда гьоркьоб кьалги букIунеб, Балаялда гьоркьоб кьогIлъиги кколеб. 445. Рокьое баге, гьанае бай. Кициялълъул магIна буго хIайваналълъе рагIи-ххер, гьелда гьан букIаго, кьара букIаго, бай, рокьоде ккун ххадуб хIайван кьара гьабизе захIмалъулилан абураб. 446. Рокьуе берцинлъи къваригIунареб, макьие къаданижо къваригIунареб. 446. Рокьуе малълъарухъан хIажалъуларевила. 447. Рокьул рачел къазе чи къваригIуна, Балагьи хIехьезе яхI къваригIуна. 448. Рокьул ццебехъан – маххссара, кьалул ццебехъан – квекIен, кьерхадул ццебехъан – гьури. 449. Рокьуцца ракьа биунеб, балаялълъ берзул нур унеб. 450. РолI бекьарас ролI лъилъулеб, муч бекьарасс муч лъилъулеб. 451. РолIуда гъорлI сусур гIадин вукIунгейила. 452. РолIул хурир ганщалги тун, ссанда ругел бачазе гIадлу гьабулел. 453. Роол къо ххасалил анкьида бащалъулебила. 454. Роол рукъ – буртина, рукъалълъул хΙуби – лълъади. 455. Роржунел жалазда гъорлI чIчIегIераб лачен гIадав. 456. Росс вокьуларей чIчIужуялда гирун бачIунеб гьорчоги гьессул гIайибалдалъун бачIунеб бугилан кколебила. 457. Росс гьавулейги – чIчIужу, росс чIвалейги – чIчIужу. 458. Росс гьечIей чIчIужу – къед биххараб рукъ. 459. Росс какулаго, рукъ кварай, гIака какулаго, нах кварай. 460. Росс квешлъани, лълъадуцца чияхъ рокьи гьабула. 461. Росс кIодо гьавулейги – чIчIужу, чIахIилIе реххулейги – чIчIужу. 462. Росс лълъикIай чIчIужу – лълъикIай, руссун лълъикIаб чу – лълъикIаб. 463. Росс реххулеб кIкIалги – лълъади, росс вахунеб щобги – лълъади. 464. Росс рихаралълъ абулебила жинда росс щакдарулилан, цIцIали рихарасс абулебила жив дибирассе вокьуларилан. 465. Росс хер гьавулейги – чIчIужу, бахIар гьавулейги – чIчIужу. ДахIаххенеро гIадин, гьабил рогIороялълъул бетIералда ххенолеб букIанила цо багIаргIеч. ХIалалав гьабигьан, гьелълъул бетIергьанчи цIеххезе, гьабирахъ чIван эххеде анила. Бищун ццебе батараб ахил бетIергьан – хъахIаб мегежалълъул херав чиясс абунила гIеч жиндир гурин, тIадеххун вугев кIудияв ваццассул батизе бегьулилан. ВитIулаго-витIулаго, гьабигьан тIаде кканила чIчIегIераб михъ-мегежалълъул гIолохъанчи – бищун кIудияв ваццассде. ГIечги гьессул ахикьа бортараб батанила. Гьабигьанасс цIакъ тамаша гьабулеб букIанила ваццазул гIумруялда. КигIан викIараниги, кодобе щвараб жоги букIинчIила. КIудияв ваццасс гьабигьан гьоболлъи гьабизе рокъове вачанила. ЧIчIужуялдаги абунила жидее цо лълъикIаб хъарпуз босун ячIайилан. БачIанила хъарпуз, россассни гьей, дагьабги лълъикIаб босун ячIа, дагьабги лълъикIаб босун ячIаян, лъабцIцIулго нахъюссинаюнила. Цинги, гьаб лълъикIаб бугилан ункъабилеб хъарпузги къотIун, гьабигьанассда гьадин бицанила. Хъарпуз жидер рокъоб цо гурони букIинчIила. ЧанцIцIул нахъ юссинаюниги, чIчIужуялълъ жиндир рагIи хвезабичIила. Гьединай чIчIужу йикIиналълъ жив херлъичIила. Руччабазул ссанагIат гьечIолъиялълъ, ххассго бищун гьитIинав ваццассул лълъадул квешлъиялълъ, жиндир гьитIинал ваццал гьагъадин херлъанила. 466. Россал ругез рокъоб бицунеб, къоролзабаз корохъ бицунеб. 467. Россасс гIатIада хIуччал хъвай – чIчIужуялълъул гIайиб, якьадалълъ царгъида кIулал рай – нусалълъул гIайиб. 468. Россасс лълъади хьихье, лълъецца гьобо ххене. 469. Россасс цIияй чIчIужу ячараб сордоялълъ, хварай чIчIужуялълъул бетIер горбодасса батIалъулебила. 470. Россассда лълъади лъабго къоялълъ юхIулейила, лълъадуда росс лъабго моцIцIалълъ вухIулевила. 471. Россассда рекъарабила лълъадул кIаз букIунеб. 472. Россассда ццим бахъани, чIчIужуялълъ лъимал руххулел, россассул ццим бахъани, чIчIужу юххулей. 473. Россассе индал – хIанкIич, хIорго йикIиндал – мокъокъ. 474. Россассе инегIан – эбел-инссул рукъ, тIад юссун ячIиндал – тушманасул рукъ. 475. Россассе инчIей яс ятагийин, чIчIужу ячинчIев вас ватагийилан гьарулебила гьардухъанасс. 476. Россассе инчIого, гIабдал лъаларей. 477. Россассе кьезе дир яс гIураб меххалълъищин хъалин кьолеб гIадат хвезабулебан абурабила гIандисселълъ. 478. Россассе уней ясалда эбелалълъ малълъарабила - «Дозул доба хъахIалда чIчIегIерабилан абулеб батани, дуццаги гьедин абе, дир яс, чIчIегIералда хъахIабилан абулеб батани, гьединги абе». 479. Россассеги ина, васги гьавила, вацц кисса вахъилев? 480. Россассул къадру-къимат лълъадудассан букIунеб. 481. Россассул рекIелI бугеб жо чIчIужуялълъул кIалдиб букIунеб. Цо ххан вукIаравила кидаго къватIиве вахъунарев «рокъов къурущ». Гьесс къоял инарулел рукIаралила, хъутIахIелеко гIадин, цоялгун вагъун, цоялгун семун, руччабазда гъорлI. Гьессие улка-ракьалълъул ургъелги букIинчIила. Улкаялълъул балъголъабиги, вазирзабазда лъалалдего, руччабазда лъалел рукIаралила. Мадугьалассул чучлъи бихьарав цоги хханасс гьессда лъазабурабила - «Бокьани, рагъде вахъа, бокьичIони, дие пуланал росаби кье!» – ян. Хханасс гьеб балъголъи бищунго йокьулей чIчIужуялда бицарабила, гьелълъги киналго руччабазда гIинчIарабила. Чара хварав ххан цо къоялълъ къватIиве вахъаравила. Къадал ракьандеги ракIарун, гьал гIиссинлъималаз бицунеб жого щибдаян гIенекканила. Бугила гьез бицунеб, мадугьалихъ вугев хханасс нилIер хханассда рагъ лъазабун рагIулила. Вагъизе къуватги гьечIого, чара хун нилIер хханги рагIулила. Гьеб меххалълъ кантIаравила ххан жиндирго гъалатIаздеги ххалкъияб кици битIараб букIиналдеги. 482. Россассулал – лълъадаре, лълъадулал – кIалалълъе. 483. Россги вугей къоролай. 484. Россги вукIуна, росдал гьабзацца квадги вукIуна, чIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна. 485. Россги ГIумаххан вугелълъул, мунгоги Бахху-бикайиланищ ккараб? 486. Росдае гIоло бицараб рагIи – росдае гIоло гьабураб хъулухъ. 487. Росдае ххиянат гьабурав росдал цIецца вухIаги. 488. Росдал анцIилI, бол нусилI. 489. Росдал газа кьурдаги рекIунеб. 490. Росдал гIадат хвеялдасса гIадатаб росу хвей лълъикIаб. 491. Росдал ххабар гIабдалассда гьикъе, рукъалълъул ххабар лъималазда гьикъе. 492. Росдацца хIукму кьуни, хIарпиеги бутIа кьезе кколеб. 493. Росс-лълъади мугъалисса руссараб рукъ – руссунареб сибиралълъул гвенд. 494. Росс-лълъади цолъичIони, рукъ беххе балагьула, рокъоб къир-къир цIцIикIкIани, дунялго къварилъула. 495. Росс-лълъади цоцазда лълъикI лъала, цоял унтараб меххалълъ. 496. Росс-лълъадиялда гьоркьове лIугьарав - гIабдал, гьорода бадиве кIурщарав – ахIмакъ. 497. Росс-лълъадиялълъул гьоркьоблъи лъала, росс жиндирго гурдеялда рукъи базе лIугьараб меххалълъ. 498. Росс-рукъ авадан гьаби лълъадул гьунар-цIцIар буго. 499. Россол рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 500. Росу балагьун, къватIив чIвагеги, къватI балагьун, басралъугеги. 501. Росу бахъун, кьурарай, кьибил бахъун, дургъарай. 502. Росу батIиялълъухъ рокьи ккогеги, Кьибил батIияйгун къадар хъвагеги. 503. Росу бихьун, си борххатаб бай. 504. Росу кIодо, ясал гIемер. 505. Росу лIугьун, къачIарав, кьибил лIугьун, вессарав. 506. Росу рикIкIун – гIадат, гIадан рикIкIун – ххассият. 507. Росу тани, росдаццаги толев. 508. Росу тун арав хвезе росулIе вачIунев. 509. Росу – цо рахъалда, Гьимат – цо рахъалда. 510. Росуго рекъараб кьал букIунареб, кьибилго рекъараб ригьин букIунареб. 511. Росугун дагIбадани, чиякълъула, чIчIужугун дагIбадани, кваникълъула. 512. РосулI гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве. 513. РосулIе унти я базарганассул гьирицца бачIунеб, я гьардохъанассул къвачIицца бачIунеб. 514. РосулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. 515. Роххел гIемералълъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералълъур магIихъаби рахъунел. 516. Рохол багьа къого гъурущ. Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби абун руго базаралда рахи бичулев вукIарав цо магIаруласс. Цо рохохъ къого гъурущ аби гIад гьабун буго рахи босулесс. 517. Рохоцца гIабдалги, гIакъилги, квешалги, лълъикIалги гIадамал жанире рачуна. Гьелдеги учуз буго гьаб, – ан жаваб кьун буго рахи бичулесс. 518. Рохъдол чед гьабурай, чияр чи веэдарай. 519. Рохьалълъ тала босичIого толаро. 520. РохьдолI букIунареб чIухIухъаналде ЧIалгIараб салам дир махил тIилалълъул! 521. РохьдолI тIохIок камулареб. 522. РохьдолI чIчIа, рохьдолI хва. 523. РохьдолI чIчIолареб хIайваналда тIил щола. 524. Рохьил хIайван рохьоб гурони чIчIоларо. 525. Рохьоб гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила. 526. Рохьоб хьараб хьодул пайда щибила. 527. Рохьоб цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ. 528. Рохьоб циги ххутIугеги, цого тIинчIалда божун. 529. Рохьоб чан камулареб, чорххолI унти камулареб. 530. Рохьобго гьечIеб талма, талмикьго гьечIеб гIанкIкI. 531. Рохьобе гIащтIийила, гIалххуде таргьайила. 532. Рохьобе кватIи гурони, гьаб пишаялълъул пайда гьечIилан абурабила гъадицца. 533. Рохьобе тΙил босуге, ралъдалIе лълъимги тIоге. 534. Рохьобе тIил босуге, тIилицца хур бекьуге. 535. Рохьовги вукIун, чIахIида цIа бакарав. 536. Рохьор гъутIбиги ращадал рукIунарелила. 537. Рохьосса вуссунаго, лъабоххида вачIа, дадал. 538. Роццалда рекъарабила рукъи букIунеб. 539. РоццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларебила. ВукIаравила кIиго гьудул. ЙикIарайила гьев кIияссего йокьулей цо ясги. Ясалълъги тIасса вищаравила жиндирго ракIалълъ восарав. Гьарунила гьезие лъималги, букIанила лълъикIабго магIишатги. Гьаб дунялалда лIугьунаребги кколаребги жо щибилахха букIунареб, ракIалдаго гьечIого, сапаралълъ цадахъ кканила дов кIиявго гьудул. Бихьуда росу-ракь гьечIеб цо авлахъалдассан унел рукIанила гьел. Дов ясалълъ тIасса вищичIесс, бахъун чвантинисса таманчагун, гьавцояссда абунила жинцца гьаб бакIалда мун чIвалилан. Цин гьудулассда кканила гьаб маххссара батилилан. Ххадуб, гьессда ракIалда бугеб жо маххссара гуреблъиги щай живго чIвазехъин вугевалиги бичIчIидал, гьасс абунила - - Дир хъизаналълъ доб меххалълъ, дун тIасса вищичIого, мун вищун вукIаравани, дида гьеб хIалихьатаб жо ракIалде ккелароан. Гьеб такъсир гьабуни, дирги дир хъизан-лъималазул гуребги, дуцца чIвазе буго дурго гIумруги… - Дирго гIумру дицца кин чIвалеб? Вихьулеб-рагIулеб бакIалда, инсанали щай гурин, хIайвангицин гьечIо. Лълъида лъалеб мун лълъицца чIваравали? Дицца мун цо хъитIнивеги реххила, тIаде ракьги хъвала – абадиялълъ мун вугеб бакIги лълъиданиги лъаларо! - РоццгьечIалълъ бищунги, гьаб дунялалда щибго балъго ххутIуларилан абула. Бачунге дуцца дудего тIаде гьеб балагь… Гьалмагъассул гьел рагIабазда тIадги велъун, хIалихьатицца гьессда таманча речIчIанила. Анила гьелдасса нахъе чанго сонги, ячанила дов хъурумсахъицца чIварассул йикIарай лълъадилъунги. Цо къоялълъ рагъида гIодов чIчIун россги вукIанила, гIисси-бикъинаб хIалтIуде юссун лълъадиги йикIанила. Дагьа-макъаб гьури бугеб къо букIанила гьеб. Киссан бачIарабали лъачIого, гьороцца босун бачIун, гьезул рагъида рещтIанила роццгьечI. Гьелълъухъги валагьун, росс велъанхъанила. Ссундайин мун велъарав, щибин дуда бихьарабан гьикъанила чIчIужуялълъ. Щибниги бихьичIин, ссунданиги велъичIилан чIчIанила росс. Валлагьин, жого бихьичIого, чи велъуларин, мун жинда велъанилан чIчIанила чIчIужу. Асс абунила, алълъ къотIанила, алълъ абунила, асс къотIанила, аххирги гьаб къецц квешаб рахъалде ссверанила. ЧIчIужу чIчIанила, гьабсагIат ссунда мун велъаравали бицинчIони, жий ячIарабго нухалълъ инссул рокъое инилан. Дуе квешезе бицинилан, гьассги жинццаго гьелълъул росс чIваялълъулги, гьелда ццебе ккараб ххабаралълъулги, “роццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларилан” гьесс абидал, живго велъиялълъулги бицанила. Гьалейин, гьаб роццгьечI бихьидал, кинабгоги ракIалде щун, велъанилан абунила. ЧIчIужу, гьабулеб хIалтIиги жибго тун, рокъожание анила. Гьенибго лъалинисса хханжарги бахъун, гIодов чIчIарав россассда асскIое ячIанила. Гьелейинхха, битIараб букIун бугин жиндир россасс абураб жойилан, хъубухъун босун къазабунила гьессул чохьолI хханжар. Цинги, жинццаго гьабураб жо бицине, росдал бегавулассухъеги ячIарайила. 540. Роцц унтичIого, хоно букIунареб (роцц унтичIого, гIанкIуялълъ хоноги гьабулареб). 541. Роццадасса цIцIикIкIун, чуги кIанцIуларо. 542. Роцен гьечIеб гIемераб квеналдасса цо роццада кунеб дагьаб квен лълъикIаб. 543. Роцен гьечIеб тIехх хханассул тепсиялдаги букIунареб. 544. РоцIцIагиян цIцIани, цIцIад багиян буртIал. 545. РоцIцIараб зодиссан цIцIер балев Аллагь. 546. РоцIцIараб къоялълъ цIцIаназде цIцIаладерил ясалги унел. 547. Роччухъе дунялги букIунаребила, вачIухъе гьоболги вукIунаревила. 548. Ругезда гьечIеланищан, гьечIезда ругеланищан ккарал жалила лъимал. 549. Ругел-гьечIел лъаларел щайтIабакьа щайила хIинкъулел, гьал къойил рихьулел щайтIаби-гIадамакьа щайила хIинкъуларел. 550. РугънатIе цIцIам щвалареб. 551. Ругъун лъечIого, би бецIцIулареб, цIцIад бачIого, тIох гIекколареб. 552. Ругъун сахлъаниги, гIуж кибего унареб. 553. Ругьунаб гуреб роццалда тIажу рекъоларебила. 554. Ругьунаб оцалълъ гIадин хур бекьуларо. 555. Рузида къад канлъи бихьунгутIи бакъул гIайиб гуреб. 556. Рузман чIирчIидулеб, шамат бадарулеб. 557. Рузманкъо битIани, киналго къоял ритIулел. 558. Рукъ бакъараб ссадакъа гьабуге. 559. Рукъ бакъараб ссадакъа – чехь бакъараб къадеквен. 560. Рукъ бала гIадамал цIунизе, ярагъ бала гIадамал гъуризе. 561. Рукъ берцинлъула къачIаялълъ, чи берцинлъула гIелмуялълъ. 562. Рукъ бечелъаги, чи гIемерлъаги. 563. Рукъ бикъидал, къоно тIамурав (Рукъ бикъун ххадуб гуребила къоно тIамулеб). 564. Рукъ босилалде, мадугьал цIеххе. 565. Рукъ гьабулареб жоялълъ къватI гьабулареб. 566. Рукъ гьечIелълъуб хъошги рукъила. 567. Рукъ гьечIессда чи лъала, чед гьечIессда мацIцI лъала. 568. Рукъ гьитIинаб букIин гьоболассдайила лъалеб. 569. Рукъ къваридав чи – лълъади квешав чи. 570. Рукъ лълъухьараб меххалълъ, хIур бахъунеб гIадат. 571. Рукъ рукъалълъ тIубаги, къайи къайиялълъ цIунаги. 572. Рукъалда асскIоб цIцIорораб иццги тун, хьуцIцIил лълъеда ххадув довегIан унарев. 573. Рукъалда лъалареб къватIалда лъан батулеб, нилIедаго бихьичIеб чияда бихьун батулеб (НилIер – чияда, чияр – нилIеда). 574. Рукъалда нах бахунареб даранги гьабуге, гьойдул балъ гьабулев чи гIадин, гIададаги хIалтIуге. 575. Рукъалда нуцIцIа гьечIев, ахикье гъалду гьечIев. 576. Рукъалда нуцIцIа лъолеб рагьизеги къазеги. 577. Рукъалдасса ххирияб бакІ гьечIеб, лъимадасса ххирияб жо гьечIеб. 578. Рукъалълъ басра гьавурав къватIалълъ ццеве кколарев. 579. Рукъалълъ бетIергьанчи гурев берцин гьавулев, бетIергьанчиясс рукъин гьабулеб. 580. Рукъалълъе кинаб бугониги пайда гьабичIеб къо – гIадада араб къо. 581. Рукъалълъул асслу – кьучIчI, хъизамалълъул асслу – чIчIужу. 582. Рукъалълъул бетIергьанасс гьумер битІичIони, гьобол тIокIав вачIунарев, тIилил бухIи гIезабуни, кето баккарулареб. 583. Рукъалълъул бетIергьанассде мутIигIлъулареб рокъоб гIадлу букIунареб. 584. Рукъалълъул гьечIолъи царгъицца баххчула, черххалълъул гьечIолъи тIингъицца баххчула. 585. Рукъалълъул иххтияр бетIергьанчияссухъ тейила. 586. Рукъалълъул къварилъи къадазда лъала, Дир рекIел къварилъи дидаго лъала. 587. Рукъалълъул къварилъи къватIиб лъагеги, къватIул ххабар рокъоб лъагеги. 588. Рукъалълъул кIалтIа хIелекоги багъулеб, кавудал кIалтIа лъималги рагъулел. 589. Рукъалълъул кIудияв меххтичIони, бертин бетулареб. 590. Рукъалълъул хIал лъималазда лъала, къватIалълъул хIал гIабдалассда лъала. 591. Рукъалълъул ургъел къадаздаги лъалеб. 592. Рукъи бай, каратI кIодолъилалде, дару гьабе, унти ххалалъилалде. 593. Рукъи бараб бугониги, ретIелги гIолеб, хъош гIадаб бугониги, рукъги бегьулеб, мамá гьечIого, чи тIуваларев. 594. Рукъи бараб ретIел ретIунаревги чи гуревила, рукъиялда тIад рукъи баравги чи гуревила. 595. Рукъзал кунарел, кули ретIунареб. 596. Рукъилан абураб бакIалде рукъгIанассеб гьецIцIо босулеб. 597. РукIкIадул рорлIигIанассеб картIиниссан оцол бетIергIанассеб квач бачIунебила. 598. РукIкIен аралълъубейила кунги унеб 599. РукIниб букIун гъулгъудун, гъалбацIалълъ чан чIваларо. 600. Румазул гулгун гIадин, габур цIцIабуцIцIунги вукIунге, эбел-эмен хварав гIадин, гIодовеги къулуге. 601. Руссун херлъичIони, чу херлъуларо. 602. Рухьен тIун, тIил бекун, виччарав. 603. РухI бащад буго, рукь бащад цIцIай! 604. РухI бихьунила хIанчIидасса би баккулеб. 605. РухI речIчIилалде тушман чIваларев рухI речIчIараб меххалълъ тушманасс чIвалев. 606. РухIалда рекъонила биги тIинкIулеб. 607. РухIалицца гIадин чи херлъуларо, мискинлъиялълъ гIадин чи къулуларо. 608. РухIел кIочон тезабулеб ракъиялълъ, квен кIочон тезабулеб ццидацца. 609. Ручун кIудияб – жаниб рак гьечIеб, тIину кIудияб – жаниб мугь гьечIеб. 610. Руччабазда балъгояб жо жундуз бицунебила. 611. Руччабазул базаралълъ рукъ ццебе тIоларо. 612. Руччаби кIодо гьарулел лълъикIав чиясс, ятим инжит гьавулев хIалихьатав чиясс. 613. Рущада гьабураб мусрада гурони толареб. 614. Рущи щваралълъубе гIанкIу бачIунеб, жалго реэдаралълъуре лъимал рачIунел. 615. Рущи щваралълъубе гIанкIу буссуна, каву кIудиялълъуве гьардохъан ссверула.

  • e | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Л l Лабалда хурги бекьуге, бугъаоцги хьихьуге. labalda [urgi bepuge, buvaocgi %i%uge. Лабаллъуда хур гьабуге, лъарал рагIалда рукъ гьабуге. labal;uda [ur habuge, ;aral rafalda ruq habuge. Лагъ гIадин хIалте, ххан гIадин кванай. lav fadin \alTe, {an fadin kwanay. Лагъги озденги данделъани, бечелъулел. lavgi o#dengi dande;ani, bexe;ulel. Лагъассул ияхIги, хIамил хъетиги – цого жо. lavaSul iya\gi, \amil ]etigi - cogo $o. Лагълъи гьабурассе хханлъи щола, хханлъун гурони вукIинарилан лIугьарассе лагълъи щола. lav;i haburaSe {an;i &ola, {an;un guroni wujinarilan /uharaSe lav;i &ola. Лъагълъиялдасса хвел лълъикIила, ссуриялдасса цIа лълъикIила. lav;iyaldaSa [wel :ijila, SuriyaldaSa `a :ijila. Лал тIамизе бегьулареб къоялълъ, къед гьабизеги бегьулареб. lal Tami#e behulareb qoya:, qed habi#egi behulareb. ЛахIту бихьаниги, рухIел бихьугеги. la\tu bi%anigi, ru\el bi%ugegi. Лачен боржаралълъуб гъеду рещтIунеб. laxen bor$ara:ub vedu re&Tuneb. Жиндирго лълъикIай чIчIужуялдаги рекъечIого, чангиясс ячуна гьелдасса къадарай. Цоги аби буго гьадинабги - «Цо багьана бугей хьихьичIесс, кIиго багьана бугей хьихьизе ккарайила». $indirgo :ijay Zu$uyaldagi reqezogo, xangiyaS yaxuna heldaSa qadaray. cogi abi bugo hadinabgi - «co bahana bugey %i%izeS, jigo bahana bugey %i%i#e Karayila» Гьедин ккараб меххалълъ абула магIарулаз гьал рагIаби. hedin Karab me{a: abula mafarula# hal rafabi. Лачен – чанабе, гъеду – рохьобе. laxen - xanabe, vedu - ro%obe. Лаченги тарулеб, тайлан хъущтIулеб, тувадахъ гурони гIодоб кколареб. laxen taruleb, taylan ]u&Tuleb, tuwada] guroni fodob Kolereb. Лаченги чучула чи гIемерлъани, чаранги биуна цIа гьалаглъани. laxengi xuxula xi femer;ani, xarangi biuna `a halag;ani. Ле, гIакълугьечI, тIуруге, гIи тун гIангис кинигин, гIадамал тун хьвадани, хьитал хун басралъулин. le, faqluhez, Turuge, fi tun fangis kinigin, fadamal tun %wadani, %ital [un basra;ulin. «Ле!» – ян ахIарассде, «Я!» – ян ахIизе кIоларев къватIиве вахъунарев. «le!» - yan a\araSde, «ya!» - yan a\i#e jolarew qwaTiwe wa]unarew. «Ле!» – ян ахIунилан, ахIмакъ нахъ вуссунарев. «le!» - yan a\unilan, a\maq na] wuSunarew. Лочноде ххиял бугев чаргъадихъ валагьуларо. loxnode {iyal bugew xarvadi] walahularo. Лочнол бетIералда чаргъеду чIчIезабуге. loxnol beTeralda xarvedu Ze#abuge. Лочнол гьава – зодобе, гъадил гьава – рохьобе. loxnol hawa - #odobe, vadil hawa - ro%obe.

  • tztz | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЦIцI ~ 1. ЦIцIад байдал биччараб бакъ щвейдал бакъвалеб. 2. ЦIцIад бан ххадуб буртина хIажалъулареб. 3. ЦIцIад бачIони, рукъ гIекколаро. 4. ЦIцIад хIаллъани, рокъове, бакъ хIаллъани, гьорове. 5. ЦIцIад чIчIун ххадуб дугъ кIочарав, рещтIун ххадуб чу кIочарав. 6. ЦIцIадакьаги ворчIун, гонгикье ккана. 7. ЦIцIадакьаги лIутун, гонгикь чIчIарав. 8. ЦIцIадал барти – буртина, гьорол къолден – къехь. 9. ЦIцIадал къалиялдасса бакъул ссахI бергьунеб. 10. ЦIцIадал къоялълъе бакъул къо камулареб, лабалда хуралълъе цIцIадал къо камулареб. 11. ЦIцIадал сон бакъараб, бакъул сон гIорцIцIараб. 12. ЦIцIадалаб сон ххарилаб, бакъулаб сон хурулаб. 13. ЦIцIадалабги гьекъана, бакъулабги къулчIчIана. 14. ЦIцIал кьун гIоларессе, чу кьуниги, гIолареб. 15. ЦIцIалани, гIелму щолеб, хIалтIани, боцIцIи щолеб. 16. ЦIцIаланщинав чи Къудукьа Мусалав вукIунарев, кьалде анщинав ХIажимурад вукIунарев. 17. ЦIцIаланщинав чияссул гIалимчи вакъунарев: цо-цо гIалимчиги вукIунев, цо-цо цIцIалунчиги вукIунев, ххутIарал чIчIинкIилалги рукIунел. 18. ЦIцIалараб гIоларебила, цIцIалкIизеги кколебила. 19. ЦIцIаларассда гIелму лъала, бихьарассда дунял лъала. 20. ЦIцIалацца буххугейила жиб, кIалцIуцца буххеян абулебила чоцца. 21. ЦIцIалдохъан лълъикIав вугилан, мекъсса кьураб жавабалълъе лълъикIаб къимат лъолареб. 22. ЦIцIалкIал рекьарулел, гьакьал лъилъарулел. Абиялълъ бицунеб буго цоцазде гIагарал кIиго магIарул росдал рикIкIадаб тIабигIаталълъул (рии чIчIейгун рекьуда байбихьулеб ЦIцIалкIитIа росдалги, гьебго заманалда нилъ бегьулеб Гьолокь росдалги). Гьелдаго цадахъ буго умумузул цо биценги. Цогидал магIарулалго гIадин, цIцIалкIалги ихдалил моцIцI хвараб меххалълъ рекьарулел рукIаралила. ЦIцIалкIитIасса цо бечедав чиясс гуржиязул довасса кквезе щварав цIияв лагъ ихдал векьаризе витIаравила. Хуриве щваравго, гьесс цо рахъ барабила, цинги, бахъун шарбалгун, рахънив гIодов чIчIаравила. Жеги ракьулIе ххинлъиго ккун гьечIилан, нахъ вуссаравила. Гьедин ун, нахъ вуссун вачIун, лагъасс хур бекьичIибила рии чIчIезегIан. Гьедин бекьи лълъикIабги батарабила. 23. ЦIцIалкIараб – росониб, цIцIалкIичеб - тIопониб. 24. ЦIцIалкIиниб камугеги, ссанкIиниб тIагIунгеги. 25. ЦIцIалкIиниб лълъимгIанги гIемераб бугила гьессул гIакълу. 26. ЦIцIалкIинисса жо тIагIани, росс-лълъадул дагIба-къецц гIемерлъулеб. 27. ЦIцIалкIицца лълъалъалареб. 28. ЦIцIалкIицца лълъим баччуге, лъаницца сали босуге. 29. ЦIцIалкIу кIутIун, кеп гьабунги, цо чед бекун, кванай гьабунги, бертин гьабичIого тогейила. 30. ЦIцIамул къали цадахъ чIчIикIичIого, гьудулассул (чияссул) хIал лъаларебила. 31. ЦIцIамул тIагIам лъаларессда лълъадал гьуинлъи лъалареб. 32. «ЦIцIам, Бичассул авараг, цIцIам»! Сулайман аварагассде киналго рухIчIаголъаби мутIигIал рукIаралила. Гьессда киназулго мацIцIги лъалеб букIарабила. Цо нухалда Сулайманицца киназего буюрухъ кьурабила цо-цо квен гьабун рачIайилан. Малълъухъе рачIаралила киналго. ЦIцIунцIцIрадулгIан тIагIам бугеб квен батичIебила. - Кин дуцца гьаб квен гьабураб? Щиб дуцца гъорлIе жубараб? – ан гьикъараб меххалълъ, цIцIунцIцIра бицинарилан лIутун унеб букIарабила. Сулайманицца, гъванкан нуцIцIаги къан, гьоркьобе ккезабураб меххалълъ, цIцIунцIцIраялълъ гьадал рагIаби ахIаралила. Гьедин нуцIцIида гьоркьоб къан букIиналъила цIцIунцIцIра бакьулIа къарабги лIугьараб. 33. ЦIцIам гьечIеб хоно, ражи гьечIеб ххинкI. 34. ЦIцIам гьечIони, гьан махIцунеб, гьури гьечIони, гьава махIцунеб. 35. ЦIцIам гьечIони, квен щай? Квен гьечIони, хIерчч щай? 36. ЦIцIар батIияб лъунилан, бацIида божиларо. 37. ЦIцIам тIамураб тIидукарщ гIадав чи. 38. ЦIцIар бахъараб бацI гIадин. 39. ЦIцIар бахъиялдасса бер бахъиго лълъикI. 40. ЦIцIар кIудияв ретIелгьечI, бетIер кIудияв гIакълугьечI. 41. ЦIцIар хисунилан, гъадил цIцIум лIугьунареб. 42. ЦIцIаруе рагIад кIудияв, гIалххуда гьаракь борххатав. 43. ЦIцIаруе ссадакъа кьурав, ссиялълъе къурбан хъурав. 44. ЦIцIваби гIемер рукIуна, моцIцI цо гурони букIунаро. 45. ЦIцIваби гIемерлъанагIан, зоб гвангъулеб, кверал гIемерлъанагIан, хIалтIи ццебе тIолеб. 46. ЦIцIвайиде бакъ щвела, лълъимацца хIетI бахъила, хIоржоялълъ бетIер бахъила, гIеркъикьан къвали баккила, къадакьан мичIчI баккила. Аби бачIун буго, ракъун ругилан лъимал зигардараб меххалълъ, эбелалълъ лъималазе бицунеб букIараб берцинаб мацIцIалдассан. 47. ЦIцIекIаб кваначIого, гьуиналълъул тIагIам лъалареб. 48. ЦIцIибил гьаркьадерил босейила, гьоло ххунздерил босейила. 49. ЦIцIикIкIараб цIцIайи мачIчIадалда лълъикIаб, гьоркьохъеб цIцIайи черххалълъе лълъикIаб. 50. ЦIцIилицIцI хвелебилан лъехьоларей, лълъим тIагIинебилан чероларей. 51. ЦIцIогь – хханассдассаги бергьараб жо. 52. ЦIцIогьги ххиянатги хабалI гурони баххчулареб (ЦIцIогьги ххиянатги хабалIги тIатунеб). 53. ЦIцIогьодун чи бечелъуларев. Цо чиясс тукадасса ххамил туп бикъун буго. Гьеб бихьарав тукенчиясс, ххадувги ун, чи ккун вуго ва гьикъун буго чахъдацца чан квегIерин гьабулеб. ЦIцIогьорасс жаваб кьун буго цо кьегIер гьабулин, нагагь-надир кIи-кIиги гьабулилан. Ххадубги бацIицца тIинчI чан гьабулебанги цIеххон буго тукенчиясс. Анкьго-микьгоги гьабулилан жаваб кьун буго цIцIогьорасс. «ВахI! – ан абун буго тукенчиясс. – Цо-цо гурони кьегIер гьабуларел чахъабазул рехъаби гIолел руго, анкьго-микьго тIинчI гьабулел бацIазул рехъаби гIолел гьечIо. Гьелълъие гIила щибдай?» ЦIцIогьор вуцIцIун чIчIун вуго. Чахъаби зарал гьечIел жал руго. БацIал цIцIогьал руго. Гьединлъидал гIадамаз гьел гъурула, гьезул рехъабиги лIугьунаро. ЦIцIогьодун чиги бечелъуларо. Ххамил тупги букIаралъуб лъе, мунги дурго нухда а! – ян абун буго тукенчиясс гьессда. 54. ЦIцIогьор бечелъуларевила, баххил кьаралъуларевила. 55. ЦIцIогьор гьедула, хъахIба гIодула. 56. ЦIцIогьор гIорцIцIуларев, гIалим вакъуларев. 57. ЦIцIогьор жиндирго рагIадалълъукьаги хIинкъулев. 58. ЦIцIогьор тIаргъил щомериялдассанги ватIа гьавизе лъалевила. 59. ЦIцIогьорассул берал мугъалда нахъаги рукIунелила. 60. ЦIцIогьоран абизе бокьичIони, бикъуге, хъахIбаян абизе бокьичIони, черхх цIуне. 61. ЦIцIогьорасс гурони, цIцIогьор веццуларев. 62. ЦIцIогьорасс жиндирго каву щула гьабулеб. 63. ЦIцIогьорассда бикъун щвараб гIурущ кепеклъун кколебила, бетIергьанчияссда бикъун араб кепек гъурущлъун бихьулебила. 64. ЦIцIогьорассе нух камулареб. 65. ЦIцIогьорассул бералго цIцIогьорал рукIуна. 66. ЦIцIогьорассул гьодил чIоло битIулебила, бетIергьанчиясс рукъалда кIулал рахан ратараб меххалълъ. 67. ЦIцIогьорассул гIадалI цIа. 68. ЦIцIодораб бералда ралъдал тIиналда бугебги бихьулеб, тоххаб бералда берзул тIелехалда бугебги бихьулареб. 69. ЦIцIодораб гIакълуялълъул калам къокъаб букIуна. 70. ЦIцIорорав ургъун вахъинегIан, гIабдалассе вас гьавулевила. 71. ЦIцIодорассул ххвалчадулалдасса гIабдалассул ххонжрол хIинкъи цIцIикIкIарабила. 72. ЦIцIодорлъи бахIарчияссеги къваригIунеб (Гулида ХIажимурад лъаларев). 73. ЦIцIодорлъиялълъул зарал гьечIеб. 74. ЦIцIолокье гъураб чодаги божуге, цIцIорове арав васассдаги божуге. 75. ЦIцIороб бицараб гьересси ИццугохIде данде бачIарабила. 76. ЦIцIоробе нух гIагараб (Ине бокьараб бакIалде нух гIагараб). 77. ЦIцIоробе унилан гъеду лаченлъиларо. 78. ЦIцIорове унев чияссда аянги абуге, унгеянги абуге. 79. ЦIцIудуцца тIутIал кколарел. 80. ЦIцIукIа жиндирго рагIадалълъукьаги хIинхъулев. 81. ЦIцIукIа къойил холевила, чIчIужугIадан, россасс тIаде цоги чIчIужу ячараб меххалълъ, холейила. 82. ЦIцIукIа рукъалълъул рахал тIаде рортун рачIиниланги хIинкъулевила. 83. ЦIцIукIа хIинкъун вукIуневила, кIуликартIиниссанги тушман вачIиневилан. 84. ЦIцIумагъудул раххчи – кьерхадул гIаламат, къватIире рахъин – роцIцIадул гIаламат. 85. ЦIцIумлъун воржарав гьанатIа рещтIаравила, гъедулъун воржарав гъоссогохIтIа рещтIаравила. 86. ЦIцIунцIцIрабазул бо гъалбацIидасса бергьунебила. 87. ЦIцIунцIцIрадул пилги гьабуге, гъалбацIил гIанкIкIги гьабуге. 88. ЦIцIунцIцIраялълъе гохIги – мегIер, дагIнил лIарги – хъинс. 89. ЦIцIуяв чи бергьунгеги, квешаб чехь къинлъугеги. 90. ЦIцIаназейилан бокьги баге, наязейилан рукъги баге. Кициялълъ бицунеб буго цIцIаниги цо ххассаб унтиялълъ хвезе бегьулел, магIарухъ наялги цин гIемерлъулел, циндаго тIагIине, гьороцца ине бегьулел жал ругилан. Цо бечедав ххарачΙиссессул рукIун руго гIемерал наялги кIудияб цIцIаназул рехьедги. Жиндир цIцIаназул рехьед рохьосса гъоркье бачIунеб меххалълъ, чуязул илхъи бачIунеб гIадаб гьаракь букIунилан веццарулев вукIун вуго гьев. Бан букIун буго кIудияб кули. РукIун руго наязе рукъзал, цIцIаназе бокьал. Нухда чуги хун, баччун гIарцуцца къачIараб кьилигун сапаралдасса вачIунев ххарайчIиссев жиндирго колоде щвараб меххалълъ, цо течIого наги тIагIун батун буго, тIагIуналъул унти щвараб гIадин, цIцIаниги гъурун ратун руго. - Гьале! Умумузул кициялълъ абухъе ккана! КIал кьураги тIоццебе квешаб пал къотIарассул! – ан абун буго гьев пакъирасс. 91. ЦIцIани гIодизарун, гIи боххизабуге (ЦIцIани гIодараб, гIиял роххараб хIалтIи). 92. ЦIцIе кIанцIаралълъуссан бурутIги кIанцIулеб.

  • xx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Гъ v 1. Гъагъал – ссогIал, кьварарал, бадибе рагIи абулел, цояб бер бахъулелълъул, цогидаб къапуларел, цинги тIаде вачIарав гьобол-гьудулассе квасгIан тамахал, нахгIан хIеренал. vaval - Sofal, pwararal, badibe rafi abulel, coyab ber ba]ule:ul, cogidab qa_ularel, cingi Tade wazaraw hobol-hudulaSe kwasfan tama[al, na[fan \erenal. 2. Гъадидаги кколебила бищунго гIакъилаб жибгойилан. vadidagi Kolebila bi&ungo faqilab $ibgoyilan. 3. Гъадидасса тIинчI лумияб. vadidaSa Tinz lumiyab. Гъадицца тIанчIида малълъулеб букIун буго, гIадамил лъимер гIодобе къулулеб бихьарабго, боржаян. ТIанчIицца абун буго - гIадамил лъимер гIодобе къулизегIанго чIчIеларила жиб, гьеб бихьарабго боржинила. Гьеб меххалълъ гъадицца гьелълъул бетIералда гозо кIутIун буго, цIцIодорил цIцIодоранги абулаго. Гьелда тIад бижараб буго «Гъадидасса тIинчI лумияб» абураб кици. vadiCa Tanzida ma:uleb bujun bugo, fadamil ;imer fodobe qululeb bi%arabgo, bor$ayan. TanziCa abun bugo - fadamil ;imer fodobe quli#efango Zelarila $ib, heb bi%arabgo bor$anila. heb me{a: vadiCa he:ul beTeralda go#o juTun bugo, ~odoril ~odorilangi abulago. helda Tad bi$arab bugo «vadidaSa Tinz lumiyab» aburab kici. 4. Гъадилаб – гъадие, цIцIудулаб – цIцIудуе. vadilab - vadiye, ~udulab - ~uduye. 5. ГъадилIа лачен. vadi/a laxen. 6. ГъадилIан лаченги лIугьунеб, лочнолIан гъедуги лIугьунеб. vadi/an laxengi /uhuneb, loxno/an vedugi /uhuneb. 7. Гъадихъе мокъокъ щолареб, щвани, инжит гьабулеб. vadi]e moqoq &olareb, &wani, in$it habuleb. 8. Гъадихъе щвараб хъарчигъаялълъ бахъулеб. vadi]e &warab ]arxivaya: ba]uleb. 9. Гъадицца лочнол бер бахъарабила. vadiCa loxnol ber ba]arabila. 10. Гъадицца гъадил бер бахъулареб, гIадамасс гIадамассул бер бахъулеб. vadiCa vadil ber ba]ulareb, fadamaS fadamaSul ber ba]uleb. 11. Гъадицца къвагъан ахIараб меххалълъ, тIанчIицца тIокIаб щибилан ахIилеб? vadiCa qwavan a\arab me{a:, TanziCa Tojab &ibilan a\ileb? 12. Гъадринибе карщгицин батIа-батIайисса чIвазе бегьулебила. vadrinibe kar&igicin baTa-baTayiSa zwa#e behulebila. 13. Гъазибегил талихI – аваданай Ххалун, Ххалунил талихI – аваданав Гъазибег. va#ibegil tali\ - awadanay {alun, {alunil tali\ - awadanaw va#ibeg. РакIалде щвезабе - «Аваданаб рукъ – рагьадго Алжан». Гъазибегги Ххалунги рукIана аваданлъиялда гIумру арал, рукъ мискинал – жалго бечедал, жалго херал – ракI бахIарал росс-лълъади. Херай Ххалуницца бицунаан, гьаб гIумруялде рахинегIан, дагьал кочIол рагIабиги абичIого, кьурдун цо-кIиго ссвериги бахъичIого, сордо бачIун, бусада хьибил лъурал росс-лълъади гурила жал. rajalde &we#abe - «awadanab ruq - rahadgo al$an». va#ibeggi {alungi rujana awadan;iyalda fumru aral, ruq miskinal - $algo bexedal, $algo [eral - raj ba\aral roS-:adi. [eray {aluniCa bicunaan, hab fumruyalde ra[inefan, dahal kozol rafabigi abizogo, purdun co-jigo Swerigi ba]izogo, sordo bazun, busada %ibil ;ural roS-:adi gurila $al. 14. Гъалай хъванилан, маххул гIарац лIугьунареб, дарай ретIунилан, хIамил чу лIугьунареб. valay ]wanilan, ma{ul farac /uhunareb, daray reTunilan, \amil xu /uhunareb. 15. ГъалатI ккедал абула илбисалълъ малълъунилан, цинги кици букIуна мунго дуццагойилан. valaT Kedal abula ilbisa: ma:unilan, cingi kici bujuna mungo duCagoyilan. 16. ГъалатI ккечIого, битIаралде ургъуларел. valaT Kezogo, biTaralde urvularel. 17. ГъалатI ккеялдасса гъалатI битIизабунгутIи кIудияб, мунагь гьабиялдасса мунагьалълъе мукIурлъи лълъикIаб. valaT KeyaldaSa valaT biTi#abunguTi judiyab, munah habiyaldaSa munaha:e mujur;i :ijab. 18. ГъалатI кколарев чи вукIунарев, малълъ кIутIулареб чу букIунареб. valaT Kolarew xi wujunarew, ma: juTulareb xu bujunareb. 19. ГъалатI кколарев чи вуго ретIун тIимугъгун, гъассда гIодов чIчIарав чи. valaT Kolarew xi wugo reTun Timuvgun, vaSda fodow Zaraw xi. 20. ГъалатI лълъилго кколебила, мунагь ккезе вукIунгейила. valaT :ilgo Kolebila, munah Ke#e wujungeyila. 21. ГъалатI нусго соналдассанги битIизабизе бегьулеб. valaT nucgo sonaldaSangi biTi#abi#e behuleb. 22. ГъалбацI асир гьабизе царал гьунар гIеларо, гъадил гунпара кьвагьун, гачил хъала тIеларо. valba` asir habi#e caral hunar felaro, vadil gun_ara pwahun, gaxil ]ala Telaro. 23. ГъалбацI гьечIеб рохьоб ци басандула. valba` hezeb ro%ob ci basandula. 24. ГъалбацI кинабго жоялдасса бергьунеб, инсан гъалбацIалдасса бергьунев. valba` kinabgo $oyaldaSa berhuneb, insan valba`aldaSa berhuneb. 25. ГъалбацI – царае ххан. valba` - caraye {an. 26. ГъалбацIазул бетIералда чахъу тараб боялдасса чахъабазул бетIералда гъалбацI тараб бо бергьунебила. valba`a#ul beTeralda xa]u tarab boyaldaSa xa]aba#ul beTeralda valba` tarab bo berhunebila. 27. ГъалбацIал гьалаглъизе гьой бетIерлъун ккогегийила. valba`al halag;i#e hoy beTer;un Kogegiyila. 28. ГъалбацIалълъ нахъе цIцIоко толеб, бахIарчиясс цIцIар толеб. valba`a: na]e ~oko toleb, ba\arxiyaS ~ar toleb. 29. ГъалбацIалълъул рачIчIлъуналдасса катил бетIерлъунго лълъикIила. valba`a:ul raZ;unaldaSa katil beTer;ungo :ijila. 30. Гъалдибералда месед бекьунилан, хIамил чу лIугьинаро. valdiberalda mesed bepunilan, \amil xu /uhinaro. 31. Гъанкъизе гъветIгицин берцинаб бищулебила. vanqi#e vwaTgicin bercinab bi&ulebila. 32. Гъанкъилищилан абурабила тIоххоцца, балагьилинхха цоян абурабила родоцца. vanqili&ilan aburabila To{oCa, balahilin{a coyan aburabila rodoCa. 33. ГъасстIа вукIун, бечелъарав мискинчи! vaSTa wujun, bexe;araw miskinxi! 34. ГъасстIа кватIани, эбел-ясалда гьоркьобги кколебила рагIи. vaSTa kwaTani, ebel-yasalda horpobgi Kolebila rafi. 35. ГъасстIа кватIани, я лълъадулгун рагIи кколеб, я гIемераб лълъим гьекъолеб. vaSTa kwaTani, ya :adulgun rafi Koleb, ya femerab :im heqoleb. 36. ГъасстIа кето кьарияй, бокьоб боцIцIи хIалакъай. vaSTa keto pariyay, bopob bo~i \alaqay. 37. ГъасстIа россассулгун рохъо бикьарай, хьагинире ххинкIал гIуж бан реххарай. vaSTa roSaSulgun ro]o biparay, %aginire {injal fu$ ban re{aray. 38. ГъасстIа цIа гьечIого, тIохда кIкIуй букIунареб. vaSTa `a hezogo, To[da Juy bujunareb. 39. Гъвалайин дие бокьулареб. vwalayin diye bopulareb. Гъвала букIун буго ххарил гIарахъалда ссверун лIугьун кваналеб. Гьеб гьойилан ккун, лIутун вачIунев чияссда гIадамаз абун буго, доб гьой гурин, гъвала бугилан. «Гъвалайин дие бокьулареб!» – ан цIцIукIа нахъ вуссун гьечIо. Гьал рагIаби ххутIун руго жо гуреб жоялдасса хIинкъарав чияссул хIакъалълъулI кицилъун. vwala bujun bugo {aril fara]alda Swerun /uhun kwanaleb. heb hoyilan Kun, /utun wazunew xiyaSda fadama# abun bugo, dob hoy gurin, vwala bugilan. «vwalayin diye bopulareb!» - an ~uja na] wuSun hezo. hal rafabi {uTun rugo $o gureb $oyaldaSa \inqaraw xiyaSul \aqa:u/ kici;un. 40. Гъвалида жибго жеги цIцIе гIечIеб бурутIилан кколебила. vwalida $ibgo $egi ~e hezeb buruTilan Kolebila. 41. Гъванща цIунулебги – мацIцI, гъванща буххулебги – мацIцI. vwan&a `unulebgi - ma~, vwan&a bu{ulebgi - ma~. 42. Гъванщу гIодулей, гIабдал елъулей. vwan&u foduley, fabdal ye;uley. 43. Гъваридаб гIурул хъуй дагьаб, гIакъилассул калам дагьаб. vwaridab furul ]uy dahab, faqilaSul kalam dahab. 44. Гъварул моцIцIу цIцIункIизе цIцIар ГIалиде ахIана, ЦIцIобалълъул накIкI щунщудун, щуб ГIумариде ккана. vwarul mo~u ~unji#e ~ar falide a\ana, ~oba:ul naJ &un&udun, &ub fumaride Kana. 45. Пачаяссул заманалда диванбегзаби рищун толаан. Гьезда гьоркьосса ришват цIцIикIкIун кьурал диванбегзабилъунги кколаан. _axayaSul #amanalda diwanbeg#abi ri&un tolaan. he#da horpoSa ri^wat ~iJun pural diwanbeg#abi;ungi Kolaan. Авар рахъалълъул Бакълъухъ бакIалдассан шаригIат диванхханаялде рищулел рукIун руго Могьохъ росулIа ГIумарги НитIа росулIа ГIалиги. Жидецца рищулезул гIемериссез ццебеккунго ГIали вищизе рагIи кьун букIун буго. Цинги, ГIумарил ришват цIцIикIкIараб меххалълъ, цIцIайи гьессде ккун буго. Цинги ГIалицца ццереххун реххссарал, магIарулазда гьоркьор кицилъун ххутIарал гьадал рагIаби абун руго. awar ra]a:ul baq;u] bajaldaSan ^arifat diwan{anayalde ri&ulel rujun rugo moho] rosu/a fumargi niTa rosu/a faligi. $ideCa ri&ule#ul femeriSe# CebeKungo fali wi&i#e ragi pun bujun bugo. cingi, fumaril ri^wat ~iJarab me{a:, ~ayi heSde Kun bugo. cingi faliCa Cere{un re{Saral, mafarula#da horpor kici;un {uTaral hadal rafabi abun rugo. 46. Гъвесс кваналессул гел рачлихъ бахъун букIунебила. vweS kwanaleSul gel raxli] ba]un bujunebila. 47. ГъветI бекидал, гIаркьалабазул бицунареб. vwaT bekidal, fadpalaba#ul bicunareb. 48. ГъветI бихьун – пихъ, чи вихьун – хIалтIи. vweT bi%un - _i], xi wi%un - \alTi. 49. ГъветI бихьун – рагIад, чи вихьун – къисмат. vweT bi%un - rafad, xi wi%un - qismat. 50. ГъветI бугеб бакIалда бихьинкетоги цIцIеги хьихьугейила. vweT bugeb bajalda bi%inketogi ~egi %i%ugeyila. 51. ГъветI гьороцца реххулеб, гIадан бугьтаналълъ толарев. vweT horoCa re{uleb, fadan buhtana: tolarew. 52. ГъветI кинаб бугониги кIваричIо, пихъ лълъикIаб бугони. vweT kinab bugonigi jwarizo, _i] :ijab bugoni. 53. ГъветI кьалбаз ккола, гIадан гьудул-гьалмагълъиялълъ ккола. vweT palba# Kola, fadan hudul-halmav;iya: Kola. 54. ГъветI пихъ бижулеб лълъикIаб, чи хIалтIулев лълъикIав. vweT _i] bi$uleb :ijab, xi \alTulew :ijaw. 55. Гъеду гъагъадунилан лочнол къимат холареб. vedu vavadunilan loxnol qimat [olareb. 56. Гъежххалатил гъеж бекаги, кунххалатил квер къотIаги. ve${alatil ve$ bekagi, kun{alatil kwer qoTagi. 57. Гъизараб чуризеялдасса чурараб цIунизе бигьаяб. vi#arab xuri#eyaldaSa xurarab `uni#e bihayab. 58. Гъизараб чуруларей, чурараб цIунуларей. vi#arab xurularey, xurarab `unularey. 59. Гъира бугони, хIалтIи жибго билълъуна. vira bugoni, \alTi $ibgo bi:una. 60. Гъира гьечIеб квалквал – хьул гьечIеб чIамчIам. vira hezeb kwalkwal - %ul hezeb zamzam. 61. Гъирун хвеялдасса хIулун хвейго бокьилилан абурабила царацца. virun [weyaldaSa \ulun [weygo bopililan aburabila caraCa. 62. ГъогъолIейила гьорчо гирулеб, бугелълъубейила боцIцIи унеб. vovo/eyila horxo giruleb, buge:ubeyila bo~i uneb. 63. Гъодоцца буххун, ралъад лIугIулареб. vodoCa bu{un, ra;ad /ufulareb. 64. Гъонода къачIони, магьида жо кколаро. vonoda qazoni, mahida $o :olaro. 65. Гъоркь рекIараб жоги хIама бугила, хIамитIа рекIаравги хIама вугила. vorp rejarab $ogi \ama bugila, \amiTa rejarawgi \ama wugila. 66. Гъоркьан баккарабги чIчIикIарав, тIассан баккарабги чIчIикIарав. vorpan baKarabgi Zijaraw, TaSan baKarabgi Zijaraw. 67. Гъоркьан гьаналав, тIассан гьоролав. vorpan hanalaw, TaSan horolaw. 68. Гъоркьан тIутIурав, тIассан ххоххорав. vorpan TuTuraw, TaSan {o{oraw. 69. Гъоркье рортизейилан кьурулIе лIугьунарел, росун инейилан гIурулIе кIанцIуларел. vorpe rorti#eyilan puru/e /uhunarel, rosun ineyilan furu/e jan`ularel. 70. Гъоркьеххун бугеб цIцIеда тIадеххун бугеб бацIицца лълъим гъабургъинабугеян абурабила. vorpe{un bugeb ~eda Tade{un bugeb ba`iCa :im vaburvinabugeyan aburabila. 71. Гъоссогъадил тIинчI гIадав. voSovadil Tinz fadaw. 72. «Гъоссол цIураб къвачIиниб гIарац-месед кин балеб, хъублъи къватIибе чIехьон, жанисса чуричIого». «voSol `urab qwazinib farac-mesed kin baleb, ]ub;i qwaTibe ze%on, $aniSa xurizogo». 73. «ГъоссолI букIун, тIотIоцца тIогьолI бугеб найиде - «Дун лъаларищ, гьвел роцц!» – ан рогьоб къабихIаб бала». «voSo/ bujun, ToToCa Toho/ bugeb nayide - «dun ;alari&, hwel roC!» - an rohob qabi\ab bala». 74. ГъотIода рекъарабила пихъги букIунеб. voToda reqarabila _i]gi bujuneb. 75. ГъотIода ццерессан унелълъул, гIащтIи роццда нахъа бахъе. voToda CereSan une:ul, fa&Ti roCda na]a ba]e. 76. ГъотIодайила гъудул рещтIунел, нохъодейила маккал ссверулел. voTodayila vudul re&Tunel, no]odeyila maKal Swerulel. 77. ГъотIодасса гъотIоде кIанцIунилан гъадил лачен лIугьинаро. voTodaSa voTode jan`unilan vadil laxen /uhinaro. 78. ГъотIое къимат – пихъ бихьун, чияссе къимат – иш бихьун. voToye qimat - _i] bi%un, xiyaSe qimat - i^ bi%un. 79. ГъотIокье гурони гIеч бортулареб. voTope guroni fex bortulareb. 80. ГъотIол борххалъи лъала, рагIадалълъухъ балагьун, чияссул ритIухълъи лъала, гIамалалълъухъ балагьун. voTol bor{a;i ;ala, rafada:u] balahun, xiyaSul riTu];i ;ala, famala:u] balahun. 81. ГъотIоцца кьалбал, гIодоре унел гьечIони, эххеде риччала. voToCa palbal, fodore unel hezoni, e{ede riXala. 82. ГъоцIоцца махх кколеб, россасс чIчIужу кколей. voToCa ma{ Koleb, roSaS Zu$u Koley. 83. Гъугъай ххеххаб накIкIалълъул цIцIад хъандаяб букIуна. vuvay {e{ab naJa:ul ~ad ]andayab bujuna. 84. Гъурщил багьа лъаларев кепкил багьаяв вукIунарев. vur&il baha ;alarew ke_kil bahayaw wujunarew. 85. ГъурщитIа гъурущ лъунила бечелъи гIолеб. vur&iTa vuru& ;unila bexe;i foleb. 86. ГъутIбузда гIазу – гъудузе бертин. vuTbu#da fa#u - vudu#e bertin. 87. ГъутIбузул гIурччинлъи кьалбазул сахлъиялда бараб букIуна. vuTbu#ul furXin;i palba#ul sa[;iyalda barab bujuna.

  • chch | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Хь % Хьаг чIчIегIерабгIаги, хъахIал ххинкIал релъуна, щакъи чIчIегIерабгIаги, хъахIаб кагъат басуна. Хьагида лълъурани, лахI бахуна, квешав чигун лIугьани, квешлъи бахуна. Хьагил хIал галида лъала, рукъалълъул хIал жанив вугессда лъала. Хьагил цIири гуреб цIцIогьохъе бертин, цIцIалкIил кIутIи гуреб балъгояб ригьин. Хьагинире рачIел ххинкIал хьагинир ратилищила. Хьагинисса гелгIанги камуларев. Хьамараб дудего буссунеб. Хьандон гIадамал холелани, ярагъ къваригIинароан. Хьаралда рекъонила хуриссаги бачIунеб. Хьаралълъуб хьараб бижулеб, питна бекьани, питна бижулеб. Хьиндалаз ххинкIал бакъде рахъулелила, ражи хьонде тIолебила. Хьитаз гьабураб чакмабаз кунеб. Хьитал къваридав чи – нух къваридав чи. Хьитал тIадго гIор бахунге. ХьодолI анкьго дару бугебила. Хьон къадараб хурул рижи къадараб. ХьонбакIил бутIрул гIадин, цоцаздасса кьурун руссарал росс-лълъадиялда асскIобалдасса кьурул нохъодаго лълъикIила. Хьонлъуда бакъваралдасса бакълъул гIатIояб лълъикIабила (цIул). Хьопода кьуричIони, тIилида бекизе кIолареб. ХьуйидалIго гьечIеб гIанкIкI – цIетIа лъураб гереги. Хьул лъурассул хIакъалдасса цIунаги. Хьул ххалат, хIалтIи къокъ. Хьул – ххалатаб жо, заман – къокъаб жо (Хьул ххалатаб жо, ххиял гIемераб жо). Хьул ххалатабила, хвел гIагарабила. Хьулал – рахъ-рахъалде щущан, хвел – гьезде чан къан. Хьулалълъул къвачIа ххалатаб жойила (Хьул ххалатаб жойила). ХьуцIцIал гIемералълъур иццал гIемерал, иццал гIемералълъур лъарал гIемерал. ХьуцIцIилI къараб хIамие бетIергьанчияссул гурони цIцIайи щолареб.

  • p | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    И i ИгиштIани, ЦIцIалкIитIа «цIцIар рагIарав багьадур!» igi^Tani, ~aljiTa «~ar rafaraw bahadur!» Анссадерил гIоралде ГIинтIилъар кIанцIарабила. anSaderil foralde finTi;ar jan`arabila. Илбисалда абурабила дудасса квешаб жого бугодаян. Илбисалълъги абурабила жиндасса квешав чи хварав какулев чи вугилан. ilbisalda aburabila dudaSa kwe^ab $ogo bugodayan. ilbisa:gi aburabila $indaSa kwe^aw xi [waraw kakulew xi wugilan Иман гьечIеб бакIалда ияхIги букIунареб. iman hezeb bajalda iya\gi bujunareb. Иман щулалъизе ккани, гIелму тIалаб гьабейила. iman &ula;i#e Kani, felmu Talab habeyila. «Инаро» бачарай рокъой ххутIарайила. «inaro» baxaray roqoy {uTarayila. Инаро дун хIорихъе, хIатIазде бакъ щвечIого, галиги бахъиларо, гурга кодой кьечIого. inaro dun \ori]e, \aTa#de baq &wezogo, galigi ba]ilaro, gurga kodoy pezogo. Инелъун бергьараб гIищкъу – саяхълъи, тезелъун гьабураб рокьи – хъахIбалъи. ine;un berharab fi&qu - saya];i, te#e;un haburab ropi - ]a\ba;i. Инжитав чияссул ишалги инжитал рукIуна. in$itaw xiyaSul i^algi in$ital rujuna. Инжилъун гIадамазда гьоркьов вукIинегIан, хIамалъун гьирикьго лълъикIила. in$i;un fadama#da horpow wujinefan, \ama;un hiripgo :ijila. Инсан вахараб борххалъиялда бараб букIунила гьессда бихьулеб майданалълъул гIатIилъи. insan wa[arab bor{a;iyalda barab bujunila heSda bi%uleb maydana:ul faTi;i. Инсанасс щибго хIехьолебила, ракъи хIехьоларебила. insanaS &ibgo \e%olebila, raqi \e%olerebila. Инсан жиндир заманалда релълъаравила вукIунев. insan $indir #amanalda re:arawila wujunew. Инсанассул жавабалълъ жиндир гIакълу борцуна, калам къокъаб бугони, къимат цIцIикIкIун гьабула. inasanaSul $awaba: $indir faqlu borcuna, kalam qoqab bugoni, qimat ~iJun habula. Инсанассул кIалдиб мацIцI рекIараб ххвалчен буго, кIалдиссан пулеб гьури гьалаглъулеб чIор буго. insanaSul jaldib ma~ rejarab {walxen bugo, jaldiSan _uleb huri halag;uleb zor bugo. Инсанассул черхх бетIергьанчиясс бачухъе билълъунеб жойила. insanaSul xer{ beTerhanxiyaS baxu]e bi:uneb $oyila. Инсанассул яхI – мугъ чIвалеб ссангар, гIадамассул кIкIвахI – бохх ккураб лангар. insanaSul ya\ - muv zwaleb Sangar, fadamaSul Jwa\ - bo{ Kurab langar. Инссудасса вас цIцIодорав лIугьин – роххелила, ваццассдасса вацц цIцIодорав лIугьин – жахIдайила. inSudaSa was ~odoraw /uhin - ro{elila, waCaSdaSa waC ~odoraw /uhin - $a\dayila. Инссудасса чIухIарав вас гIемерав вукIуна, чIарбида эмен лъедал, чияр цIцIобалде кколев. inSudaSa zu\araw was femeraw wujuna, zarbida emen ;edal, xiyar ~obalde Kolew. Инссул къадруялда чIчIа. inSul qadruyalda Za. Гьеб букIана мискинзаби кидаго мискин рукIа, къуралги кидаго къунги хунги рукIаян абулел абадиялълъ тIалъи жидеего бокьаразул аби. Гьеб мурад цIунун рижарал рукIана «ЛълъикIлъи хIехьезе аххтачодаги хханассул васассдаги гурони кIоларо», «АхIун вачун, бачавехь таххбакIалда толаро» гIадал кицаби. «БукIинчIеб рокъоб рекъечIеб бетIергьанчихвад» гIадал абиялги. heb bujana miskin#abi kidago miskin ruja, quralgi kidago qungi [ungi rujayan abulel abadiya:gi Ta;i $ideyego bopara#ul abi. heb murad `unun ri$aral rujana «:ij;i \e%e#e a{taxodagi {anaSul wasaSdagi guroni jolaro», «a\un waxun ta{bajalda tolaro» fadal kicabi. « bujinzeb roqob reqezeb beTerhanxi[wad » fadal abiyalgi. Инссул сагIадат бихьун, васассе къимат кьоге. inSul safadat bi%un, wasaSe qimat poge. Инссул сагIадаталълъул васассе ххайир гьечIо, жиндир сияразухъе ссурукълъи ккун батани. inSul safadata:ul wasaSe {ayir hezo, $indir siyara#u]e Suruq;i Kun batani. Инссул ццин цаххбиниб. Налъи холареб, би бакъвалареб. inSul Cin ca{binib. na;i [olareb, bi baqwalareb. Бицен буго. Васассул эмен чияцца чIван вукIун вуго, гьев эбелалълъ гьавилалдего. Бидулав херлъун вуго, вас гIун вачIун вуго. ГодекIанир ихдалил бакъалда курмул роркьулел рукIун руго херал чагIи. Дагьал дорегIан маххссаро-ххочIалда, цоцазул мугжул кIкIвалел рукIун руго гIолохъабиги. Цо херав чиясс гIолохъабазда жиндир гъоркьамегеж кIкIваян абун буго. Жинцца кIкIвалилан, дов эмен чIвараб меххалълъ ургьив вукIарав васасс нус кодобе босун буго. Мегеж кIкIвалеб меххалълъ, гьесс гьикъун буго - «КIудияв чи, бидуе хъукьлъи букIунебищ?» – ан. Гъоссги жаваб кьун буго букIунарилан. «Ма, букIунареб батани!» – ян васассги эмен чIварав чияссул бидул гIор биччан буго. bicen bugo. wasaSul emen xiyaCa zwan wujun wugo, hew ebela: hawilalde. bidulaw [er;un wugo, was fun wazun wugo. godejanir i[dalil baqalda kurmul rorpulel rujun rugo [eral xafi. dahal dorefan ma{Saro-{ozalda, coca#ul mug$ul Jwalel rujun rugo folo]abi. co [eraw xiyaS folo]aba#da $indir vorpamege$ Jwayan abun bugo. $inCa Jwalilan, dow emen zwarab me{a: urhiw wujaraw wasaS nus kodobe bosun bugo. mege$ Jwaleb me{a:, heS hiqun bugo - «judiyaw xi, biduye ]up;i bujunebi&?» - an. voSgi $awab pun bugo bujunarilan. «ma, bujunareb batani!» - yan wasaSgi emen zwaraw xiyaSul bidul for biXan bugo. Умумузул гьал кицаби руго инсан гьечIел питнабазде ахIулел кIалзул гIарадаби. РукIун руго питнаби цо кIалъараб кIалалълъ рикIкIен гьечIел биял гIодоре тIуралги. РецIелалълъе цIцIараб заман букIинчIо, гьелълъул гIорхъи букIана ссанагIат рекъараб къо. umumu#ul hal kicabi rugo insan hezel _itnaba#de a\ulel jal#ul faradabi. rujun rugo _itnabi co ja;arab jala: riJen hezel biyal fodore Turalgi. re`ela:e ~arab #aman bujinzo, he:ul for]i bujana Sanafat reqarab qo. Инссухъ ралагьун, васги лъалевила, васассухъ ралагьун, эменги лъалевила. inSu] ralahun, wasgi ;alewali, wasaSu] ralahun, emengi ;alewila. Инссухъ ралагьун, яс кье, эбелалълъухъ ралагьун, яс яче. inSu] ralahun, yas pe, ebela:u] ralahun, yas yaxe. ИнчIевани лъаргIиве, лъачIевани Магьдида. inzewani ;arfiwe, ;azewani mahdida. ИнчIого къоги беццуге, вихьичIого чиги веццуге. inzogo qogi beCuge, wi%izogo xigi beCuge. ИнчIого ххаселги беццуге, хвечIого нуцалчиги веццуге. inzogo {aselgi beCuge, [wezogo nucalxigi weCuge. Инссуда малълъаруге, гьесс малълъараб гьабе. inSuda ma:aruge, heS ma:arab habe. Инссуеги лъимал жиндиего жо кьолел рокьулел. inSuyegi ;imal $indiyego $o polel ropulel. Инссул адаб тарав васассдассаги цIунаги, къо ккедал ватуларев ваццассдассаги цIунаги. inSul adab taraw wasaSdaSagi `unagi, qo Kedal watularew waCaSdaSagi `unagi. Инссул боцIцIуцца гьаглъарассдассан пайда бахунареб. inSul bo~uCa hag;araSdaSan _ayda ba[unareb. Инссул гьоболги тоге, эбелаб нухги тоге. inSul hobolgi toge, ebelab nu[gi toge. Инссул гIамал гьечIев вас ватуларо, бацIил гIамал гьечIеб тIинчI букIунаро. inSul famal hezew was watularo, ba`il famal hezeb Tinz bujunaro. Инссул кIал чIвазе раскIил кIиго ругIел гIолеб. inSul jal zwa#e rasjil jigo rufel foleb. Инссул малълъ босуларев вас лIугьунгеги, эбелалдасса бергьарай яс лIугьунгеги. inSul ma: bosularew was /uhungegi, ebelaldaSa berharay yas /uhungegi. Инссул нигIматал кунелълъул, эменги кIочон тоге. inSul nifmatal kune:ul, emengi joxon toge. Инссул нухдассанила васги унев (инссул квартIа-гъецI босуларев вас вукIунарев). inSul nu[daSanila wasgi unew (inSul kwarTa-ve` bosularew was wujunarew). Инссул рател бичарасс бачаго хIал росула. inSul ratel bixaraS baxago \al rosula. Инссул рокьи ккун, васассе ячарайила, эбелалълъул рокьи ккун, яс кьурайила. inSul ropi Kun, wasaSe yaxarayila, ebela:ul ropi Kun, yas purayila. Инссул росу тарассда лълъикIаб къо бихьуларо. inSul rosu taraSda :ijab qo bi%ularo. «Инссул рукъбугьадил орорго ражидул букIун буго!» – ян абурабила гIандиссесс. «inSul ruqbuhadil ororgo ra$idul bujun bugo!» - yan aburabila fandiSeS. Инссул ххам бугони, гурдал ххалатал, рокъоб хханжу бугони, ххинкIал чIахIиял. inSul {am bugoni, gurdal {alatal, roqob {an$u bugoni, {injal za\iyal. Инссул цIцIар – васассе, росдал цIцIар – киназего. inSul ~ar - wasaSe, rosdal ~ar - kina#ego. Инссуцца бекьараб васасс лъилъулеб. inSuCa beparab wasaS ;i;uleb. Инссуцца ххер бичани, васасс хур бичулеб. inSuCa {er bixani, wasaS [ur bixuleb. Инссуцца соно квани, лъималазул цаби секколел. inSuCa sono kwani, ;imala#ul cabi seKolel. ИнчIого, хвечIого чияссул къимат лъаларебила. inzogo, [wezogo xiyaSul qimat ;alarebila. Ирс бикьулелълъул гьоркьов ххутIарав. irs bipule:ul horpow {uTaraw. Ирсалълъе щвараб гъамасс цIураб меседалдасса васассул кверзул маххщел бергьунебила. irsa:e &warab vamaS `urab mesedaldaSa wasaSul kwer#ul ma{&el berhunebila. Исана сон савуд хварабгIаги. isana son sawud [warabfagi. Исана тIад восила, тIадеялълъул лълъим лъала. isana Tad wosila, Tadeya:ul :im ;ala. Кици гIунтIизабула Авар гIоралълъ вас восун арай ГьидалIа эбелалде. Эбелалда вихьун вуго гIоралда тIад восун жиндирго лълъим лъаларев вас. Йоххизеги йоххун эбелалълъ гьал рагIаби абун руго. Гьеб магIнаялдани гуро жакъа гьеб кици хIалтIизабулеб. Гьеб хIалтIизабула «Инсан ццевеххун цойидассан унаро, дагь-дагьккун уна» абураб магIнаялда. kici funTi#abula awar fora: was wosun aray hida/a ebelalde. ebelalda wi%un wugo foralda Tad wosun $indirgo :im ;alarew was. yo{i#egi yo{un ebela: hal rafabi abun rugo. heb mafnayaldagi guro $aqa heb kici \alTi#abuleb. heb \alTi#abula «insan Cewe{un coyidaSan unaro, dah-dahKun una» aburab mafnayalda. Исхъалидул чухъида хъабарча бащалъиларо. is]alidul xu]ida ]abarxa ba&a;ilaro. Итни къо къоялгун шагьадулеб. itni qo qoyalgun ^ahaduleb. Их бащалъизегIан божи бугеб хур тоге. i[ ba&a;i#efan bo$i bugeb [ur toge. Их лълъамалъичIони, лълъидир бакъвалъулареб. i[ :ama;izoni, :idir baqwa;ulareb. Ихдал гьури – гьанал барти. i[dal huri - hanal barti. Ихдал нилIецца кьолеб, ххаслихъе нилIее кьолеб. i[dal ni/eCa poleb, {asli]e ni/eye poleb. Ихдал хур реххун тоге, ххасало рукъ реххун тоге. i[dal [ur re{un toge, {asalo ruq re{un toge. Ихдал хурибе бачIони, ххаслихъе цагъринибе балареб. i[dal [uribe bazoni, {asli]e cavrinibe balareb. Ихдал хIама къинлъугеги, хIалтIулI чIчIужу къинлъугеги. i[dal \ama qin;ugegi, \alTu/ Zu$u qin;ugegi. Ихдалил къо – къоролалълъул ракI. i[dalil qo - qorola:ul raj. Ихдалил къоялдаги къадарав бихьинчияссдаги божизе бегьуларел. i[dalil qoyalgi qadaraw bi%inxiyaSdagi bo$i#e behularel. Ихдалил къоялълъ лъагIалицца кваназарулел. i[dalil qoya: ;afaliCa kwana#arulel. Ихдалил лълъалъ – карае, ххасалил лълъалъ – кьолбое. i[dalil :a; - karaye, {asalil :a; - polboye. Ицц бацIцIадаб бугони, гIорги бацIцIадаб букIуна. iC ba~adab bugoni, forgi ba~adab bujuna. Иццул бетIералда гурони, тIокIкIараб лълъим букIунареб. iCul beTeralda guroni, ToJarab :im bujunareb. Иццул лълъим щоларелълъуб лъарал лълъимги – иццул лълъим. iCul :im &olare:ub ;aral :imgi - iCul :im. ИчIгоялълъ гьабе, лъабгоялълъ кванай. ixgoya: habe, ;abgoya: kwanay. Иш лъалев анцIгояссдасса хIалтIулев цо чи лълъикIав. i^ ;alew an`goyaSdaSa \alTulew co xi :ijaw. ИяхI баччулаго, хIулун тIагIарав, хварал рукъулаго, вакъуцца хварав. iya\ baXulago, \ulun Tafaraw, [waral ruqulago, waquCa [waraw. ИяхI бугев цин хола, къадарав кIицIцIул хола. iya\ bugew cin [ola, qadaraw ji~ul [ola. ИяхI гьечIого хьвадарассе – дуниял гIатIидаб жо. iya\ hezogo %wadaraSe - duniyal faTidab $o. ИяхI лъолелълъуб чед лъурав, чохьохъ чIахъен бичарав. iya\ ;ole:ub xed ;uraw, xo%o] za]en bixaraw. ИяхIги хIалихьалъиги хабалIеги цадахъ билълъунеб. iya\gi \ali%a;igi [aba/egi cada] ni:uneb. Йихьизе берцинай лълъикIай, ятизе гIакъилай лълъикIай. yi%i#e bercinay :ijay, yati#e faqilay :ijay. Йокьизеялдасса рихине захIматабила. yopi#eyaldaSa ri[ine #a\matabila. Йокьанщинай ясги щоларей, бицанщинаб рагIиги батулареб. yopan&inay yasgi &olarey, bican&inab rafigi batulareb. Йихьугеги, рагIугеги, дида гурхIаралда Аллагь гурхIаги! yi%ugegi, rafugegi, dida gur\aralda allah gur\agi! Йокьуларей лълъади – бокьулареб квен. yopularey :adi - bopulareb kwen.

  • tsts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    г g 1. Габур бугони, рукь камиларо. gabur bugoni, rup kamilaro. 2. Габур хъазилай, хъвата гIакдалай. gabur ]a#ilay, ]wata fakdalay. 3. Габур тIерен, тIоноцIцI бегIер. gabur Teren, Tono~ befer. 4. Гагу хунилан, хур бекьичIого толареб. gagu [unilan, [ur bepizogo tolareb. 5. Гагуги Мадинатги гIадин. gagugi madinatgi fadin. 6. Гажаз бессаралдасса квераз бессараб лълъикIабила. ga$a# beSaraldaSa kwera# beSarab :ijila. 7. Гажал гьечIеб бацI букIунареб, квач гьечIеб ххасел букIунареб. ga$al hezeb ba` bujuneb, kwax hezeb {asel bujunareb. 8. Галицца буххун, ралъад лIугIулареб. galiCa bu{un, ra;ad /ufulareb. 9. Гама лълъикIаб букIиналълъ ракъдада хьвадуларо. gama :ijab bujina: raqdada %wadularo. 10. ГамачI гебегунилан, мугIрул багьа холареб, бахIри чапдонилан, ралъдал лълъим хъублъулареб. gamaz gebegunilan, mufrul baha [olareb, ba\ri xa_donilan, ra;dal :im ]ub;ulareb. 11. ГамачI гIедегIуларо, гIадан хIал ккун чIчIоларо. gamaz fedefularo, fadan \al Kun Zolaro. 12. ГамачI речIчIаниги, руз холеб, ганчIилI речIчIаниги, руз холеб. gamaz reZanigi, ru# [oleb, ganzi/ reZanigi, ru# [oleb. 13. ГамитIаги вукIун, гамихъангун вагъуге. gamiTagi wujun, gami]angun wafuge. 14. Гамихъангун кьал гьавуге, кьурулIа на бахъуге. gami]angun pal hawuge, puru/a na ba]uge. 15. ГанчIал рухьун, гьаби риччан. ganzal ru%un, habi riXan. Аби гIунтIизабула магIарухъе вачIун вукIарав гIарабассде. abi funTi#abula mafaru]e wazun wujaraw farabaSde. Жидерго гIадамаз гьессда гьикъарабила Дагъистан кинаб бакI батарабилан. Гьессги абурабила, гьаби риччараб, ганчIал рухьараб бакI батанилан. ГIадамал кинал ругелан гьикъараб меххалълъги абурабила, цIцIад хIаллъани, роцIцIагиян гьардолел, роцIцIен ххалалъани, цIцIад багиян гьардолел, Аллагьассда малълъарулел чагIи ратанилан. $idergo fadama# heSda hiqarabila davistan kinab baj batarabilan. heSgi aburabila, habi riXarab, ganzal ru%arab baj batanilan. fadamal kinal rugelan hiqarab me{a:gi aburabila, ~ad \al;ani, ro~agiyan hardolel, ro~en {ala;ani, ~ad bagiyan hardolel, allahaSda ma:arulel xafi ratanilan. - Дин? - din? - Динги гьабула, ссадакъаги кьола, лълъикIал гIалимзабиги руго. Цинги инсанассде бачIунеб балагьалълъул бищунго кIудияб жо хвел буго. Гьеб кIудияб къварилъи тIаде бачIараб къоялълъ хварассул хъизан, росс хварай лълъади, бессдаллъун ххутIарал лъимал, херал умумул – росуго тIаделъун, хIулун лъола. - dingi habula, Sadaqagi pola, :ijal falim#abigi rugo. cingi insanaSde bazuneb balaha:ul bi&ungo judiyab $o [wel bugo. heb judiyab qwari;i Tade bazarab qoya: [waraSul ]i#an, roS [waray :adi, beSdal;un {uTaral ;imal, [eral umumul - rosugo Tade;un, \ulun ;ola. ГIарабазул гьеб лълъикIаб нассихIат битIухъ гьабула жиндир заманалълъул кIудияв гIакъил, гIалимчи, кочIогьан Инххосса ГIалихIажияссул рагIабазги. faraba#ul heb :ijab naSi\at biTu] habula $indir #amana:ul judiyaw faqil, falimxi, kozohan in{oSa fali\a$iyaSul rafaba#gi. “Керен бухIулареб патихIа тIамун, АлхIам цIцIалилалде боцIцIул бицина. Будун-дибирилан дундун гьабила, Дунги варисилан цоги вачIина. Дуцца нахъе тарал дур ятимазул ТIутIун босун ина мискинаб боцIцIи. ДутIа бугеб налъи тIобитIилалде, ТIанкIелаго лълъвина лайла бачине. МаржухIаб щиналда гIамалги гьабун, ХIал къвагъун реххила рукъалълъул агьлу!” 16. ГанчIидасса тIотIоегIан рукъалълъе пайда гьечIев. ganzidaSa ToToyefan ruqa:e _ayda hezew. 17. Ганщида данде баси балареб. gan&ida dande basi balareb. 18. Ганщида ххаххараб бече хIарщулI гебергахъдулебила. gan&ida {a{arab bexe \ar&ul geberga]dulebila. 19. Гаргадизе лъалеб гьечIони, гаргадичIого вукIинегIаги лъазе ккола. gargadi#e ;aleb hezoni, fargadizogo wujinefagi ;a#e Kola. 20. ГарцIцIида кколебила кинабго мегъ жиндирилан, къоркъода кколебила киналго лълъиназул иххтияр жиндихъилан. gar~ida Kolebila kinabgo mev $indirilan, qorqoda :olebila kinalgo :ina#ul i{tiyar $indi]ilan. 21. ГарцIцIил кочIодасса найил зузуйго лълъикIила. gar~il kozodaSa nayil #u#uygo :ijila. 22. Гвавул роценги дие, роцадул тIеххги дие. gwadul rocengi diye, rocadul Te{gi diye. 23. ГвавулIе чу гьарани, хIамагIаги биччалеб. gwawu/e xu harani, \amafagi biXaleb. 24. Гважул хIал лъачIого, чолониб гIанкIкI къинлъулареб. gwa$ul \al ;azogo, xolonib fanJ qin;ulareb. 25. Гважуцца рачIчI хьвагIичIого, тула ххадуб унаребила. gwa$uCa raZ %wafizogo, tula {adub unarebila. 26. ГванзгIулбузе ххер барай, ххуххазе накку барай. gwan#fulbu#e {er baray, {u{a#e naKu baray. 27. Гванзаб хIал, хIораб ракь. gwan#ab \al, \orab rap. 28. Гванзкуйдул квилу кидадай бортилаян ххадуб бекерулеб цер гIадин. gwan#kuydul kwilu kidaday bortilayan {adub bekeruleb cer fadin. 29. Гебергизе хIур гурила, хIанчIизе заз гурилан, магIарде гъураб хIама лIутун бачIарабила. gebergi#e \ur gurila, \anzi#e #a# gurilan, mafarde vurab \ama /utun bazarabila. 30. Гени-гIеч гъоркьа тIаде аххирулебила, ххурма-цIулакьо тIассагъоркье аххирулебила. geni-fex vorpa Tade a{irulebila, {urma-`ulapo TaSavorpe a{irulebila. 31. Гени чIван, гIеч бищуге. geni zwan, fex bi&uge. 32. Гени чIван, гIеч чIван, гьабураб магIишат аххирги пасалъула. geni zwan, fex zwan, haburab mafi^at a{irgi _asa;ula. 33. ГермитIа бараххщарай къоролалълъ квен лIугIизегIан хIама цIулал бухIарабила. germiTa bara{&aray qorola: kwen /ufi#efan \ama `ulal bu\arabila. 34. Гирулеб гьецIоялда хIет бижулареб. giruleb he`oyalda \et bi$ulareb. 35. Гирун унеб эбелалълъул ракIалълъ гьикъарабила - вай, дир ххирияв вас, цIакъ унтарабищ, талихI кьун воххаяв, квеш тункарабищ? girun uneb ebela:ul raja: hiqarabila - way, dir {iriyaw was, `aq untarabi&, tali\ pun wo{ayaw, kwe^ tunkarabi&? 36. Гогьав херассдассаги цIунагийила, гьитIинго херлъарав гIолилассдассаги цIунагийила. gohaw [eraSdaSagi `unagiyila, hiTingo [er;araw folilaSdaSagi `unagiyila. 37. ГодекIан лълъикIаб жо, хIикматал щвани, хIалихьатал чагIалI гIодор чIчIечIони. godejan :ijab $o, \ikmatal &wani, \ali%atal xafa/ fodor Zezoni. 38. ГодекIаниб бицине бегьулареб жо чIчIужуялда бицунге. godejanib bicine behulareb $o Zu$uyalda bicunge. 39. ГодекIаниб кIал цIуне, чияр рокъоб бер цIуне. godejanib jal `une, xiyar roqob ber `une. 40. ГодекIаниб лълъикIаб жо миккихIехьила. godejanib :ijab $o miKi\e%ila. 41. ГодекIаниб тIом биххани, бетIергьанчияссе тIукъби камулел. godejanib Tom bi{ani, beTerhanxiyaSe Tuqbi kamulel. 42. ГодекIанив гуревила бахIарчи лъалев, рагъдайила. godejaniw gurewila ba\arxi ;alew, ravdayila. 43. ГодекIанив къварид гьавурасс, дикьа къолей рокъой йигилан, чIчIужу юххарайила. godejaniw qwarid hawuraS, dipa qoley roqoy yigilan, Zu$u yu{arayila. 44. ГодекIанив цIакъав гIалххуда вагъуларев. godejaniw `aqaw fal{uda wavularew. 45. Гозо ссверичIеб жоялълъ гьан кунареб. go#o Swerizeb $oya: han kunareb. 46. ГорботIа рокьо гурев, рукьалтIа цедер гурев. gorboTa ropo gurew, rupalTa ceder gurew. 47. Гордал рагьиларилан чIчIарасс нуцIцIа рагьизе кколеб. gordal rahilarilan ZaraS nu~a rahi#e Koleb. 48. Гордухъан бачIараб, гордухъан унеб. gordu]an bazarab, gordu]an uneb. 49. Горил рагIал гьечIеб, рагIул аххир гьечIеб. goril rafal hezeb, raful a{ir hezeb. 50. Горо чIахIиял жалила лъимал. goro za\iyal $alila ;imal. 51. ГохIда гьабун, хIор чIчIолареб, къан хIамил рачIчI букIунареб. go\da habun, \or Zolareb, qan \amil raZ bujunareb. 52. ГудратIа моххмохх гурони, чIобого кьолеб жо букIунареб. gudraTa mo{mo{ guroni, zobogo poleb $o bujunareb. 53. ГудратIа тIатIи гIункIкI гIорцIцIизе гуребила балеб, гIункIкI кквезейила. gudraTa TaTi funJ for~i#e gurebila baleb, funJ Kwe#eyila. 54. ГудратIе ккани, гъалбацIги кколебила. gudraTe Kani, valba`gi Kolebila. 55. Гулгун хурибе инаро, ххума чIарадиларо. gulgun [uribe inaro, {uma zaradilaro. 56. Гула-ххер гьечIони, чан щоларо. gula-{er hezoni, xan &olaro. 57. Гулида гIанкIкIги речIчIулеб, гIанкIкIида гулаги речIчIулеб. gulida fanJgi reZuleb, fanJida gulagi reZuleb. 58. Гулида ХIажимурад лъаларо. gulida \a$imurad ;alaro. Цо нухалълъ Шамилил наиб ХIажимурадида тIаде гула балеб букIун буго. ХIажимурадида гьикъун буго - «Щай мун, цIакъав бахIарчи, гулидасса ваххчарав?» – ан. ХIажимурадицца гьадаб къокъаб жаваб кьун буго. co nu]a: ^amilil naib \a$imuradida Tade gula baleb bujun bugo. \a$imuradida hiqun bugo - "&ay mun, `aqaw ba\arxi, gulidaSa wa{xaraw?" - an. \a$imuradiCa hadab qoqab $awab pun bugo. 59. Гулицца цояв чIвала, мацIцIалълъ нусгояв чIвала. guliCa coyaw zwala, ma~a: nusgoyaw zwala. 60. ГунащмагIна гьабуге, битIаралълъе нух биччай. guna&mafna habuge, biTara:e nu[ biXay. 61. Гурга кварал, чед кварал чиядаго рагIичIо, цо квараб дир макари годекIаниб лъун буго. gurga kwaral, xed kwaral xiyadago rafizo, co kwarab dir makari godejanib ;un bugo. 62. Гургинаб тIад чIчIолареб, чIчIинтIараб гирулареб. gurginab Tad Zolareb, ZinTarab girulareb. 63. Гурде хIебтил букIаниги кIваричIо, хIара меседил бугони. gurde \ebTil bujanigi jwarizo, \ara mesedil bugoni. 64. Гурдида гурони, черххги бихьичIей, чаххтIида гурони, гъалги бихьичIей. gurdida guroni, xer{gi bi%izey, xa{Tida guroni, valgi bi%izey. 65. ГурдилI цIул гьабе, цIулалълъ гъабу гьабе. gurdi/ `ul habe, `ula: vabu habe. 66. ГурхIараб бихьугеги, хIинкъараб бачIунгеги! gur\arab bi%ugegi, \inqarab bazungegi! 67. ГурхIун гIоданиги, бухIун гIодизе ккогеги. gur\un fodanigi, bu\un fodi#e Kogegi. 68. ГурцIаб гIи хьихье, гIобаб цIцIе хьихье. gur`ab fi %i%e, fobab ~e %i%e. Бицен буго, гIухьби рукIаралила жидерго гIигун цо нохъода. Цойидассан нохъодул кIалтIуги тIун, гьел ххутIаралила жанирго. ГIухьбиги гIиги чIаго рукIин лъаниги, гIадамазул хIал гIечIебила, тIаде нух бахъун, гьел ххвассар гьаризе. ГIухьбузул гара-чIвари рагIулеб букIарабила, воре, гурцIаб гIиги хьихье, гIобаб цIцIеги хьихье, гьаб кIиялълъгогIан къо хIехьолеб жо гьечIилан. Кицилъун лIугьарал гьезул рагIабиги, гьез ахIулеб букIараб кечIги, гьез бачарабилан абулеб “Нохъода хваразул бакъанги” нилIер ххалкъалълъ нахъе цIунун руго. bicen bugo, fu%bi rujaralila $idergo figun co no]oda. coyidaSan no]odul jalTugi Tun, hel {uTaralila $anirgo. fu%bigi figi zago rujin ;anigi, fadama#ul \al fezebila, Tade nu[ ba]un, hel {waSar hari#e. fu%bu#ul gara-zwari rafulareb bujarabila, wore, gur`ab figi %i%e, fobab ~egi %i%e, hab jiya:gofan qo \e%oleb $o hezilan. kici;un /uharal he#ul rafabigi, he# a\uleb bujarab kezgi, he# baxarabilan abuleb "no]oda [wara#ul baqangi" ni/er {alqa: na]e `unun rugo. 69. Гучги жанги жо гуро, жанив дацци гьечIони. guxgi $angi $o guro, $aniw daCi hezoni. 70. Гучид ца бихьичIого, царад магъ хьвагIулареб. guxid ca bi%izogo, carad mav %wafulareb. keren bu\ulareb _ati\a Tamun, al\am ~alilalde bo~ul bicina. budun-dibirilan dundun habila, dungi warisilan cogi wazina. duCa na]e taral dur yatima#ul TuTun bosun ina miskinab bo~i. duTa bugeb na;i TobiTilalde, Tanjelago :wina layla baxine. mar$u\ab &inalda famalgi habun, \al qwavun re{ila ruqa:ul ahlu.

  • g | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Р r 1. Рагъ ккараб меххалълъ гуребила ярагъ хIадурулеб, рагъ ккелалдейила. 2. Рагъалдасса рекъел лълъикIаб. 3. Рагъалълъ вас гьавуларо, гьавурав чIван гурони. 4. Рагъалълъ къед баларо, бараб биххун гурони. 5. Рагъда щив бергьаравали, рагъ лIугIидал лъала, чIчIужуялълъ васищ гьавилевали, къинлъидал лъала. 6. Рагъде вахъиналде мунгоги лъай, дурго тушманассул къуватги лъай. 7. Рагъде лIутизе гурелила унел, рагъизейила. КIийидеги рекъав цо рагъухъан рагъде унев вукIанила. Данде ккарасс гьессда абунила, - Ле талихIкъад! ЛIутизе ккани, дуцца щиб гьабилеб? Бищун ццеве ххадув гъурасс чIван реххила гури мун! - Рагъде лIутизе гуро унел, рагъизеги бергьинеги уна! – ян жаваб кьунила рекъав рагъухъанасс. 8. Рагъидаго – бакъ, къотIнобго – мажгит. 9. Рагъулебги гIадат, рекъолебги гIадат. 10. Рагъун рихьунила белехь рекъарал. 11. Рагьуге ракI, рагьани, къаге. 12. РагьумахIугIан бегизе захIматаб мегIер гьечIеб. 13. РагIабаз гуребила калам берцин гьабулеб, магIнаялълъила. 14. РагIал бахъараб, ракьан бахъичIеб каламалдасса цIунаги. 15. РагIал бахъун, хур бекье, ракьан бахъун, бокь хъващтIе. 16. РагIал гьечIеб майдан букIунареб. 17. РагIалалдасса ракьан лълъикIаб. 18. РагIанщинаб бицаравги – гьерссихъан, бихьанщинаб бицаравги – мацIцIихъан. 19. РагIанщинаб бицинги мунагьила. 20. РагIанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб. 21. РагIарав нусго нугIассдасса бихьарав цо нугIго лълъикIавила. 22. РагIаралдасса бихьараб битIараб. 23. РагIи абилалде лъабцIцIул ботIрониб ссверизабейила. 24. РагIи бадибе лълъикIаб, тIил мугъалде лълъикIаб. 25. РагIи бакI бихьунила абизе кколеб. 26. РагIи баччуларесс зар баччулеб. 27. РагIи бице, бакI бихьун, ургъел бикье, чи вихьун. 28. РагIи бице, магIна бугеб, кици тIаме, гогьар бугеб. 29. РагIи бугеб рукъалдасса магIу бугеб рукъго лълъикIаб. 30. РагIи гьабизе – нус, нису кваназе – яс. 31. РагIи гьабуларесс боцIцIи хьихьуларо. 32. РагIи гьечIони, кечI букIунареб, гамачI гьечIони, къед букIунареб. 33. РагIи гьорое биччалев Гьорол МухIума. 34. РагIи гьуинаб бицун, гьоло кунев бетIеркъотI! 35. РагIи гьуинассул гьудул гIемерав, кIал хъачIассул тушман гIемерав. 36. РагIи гIакъил – гIакълугьечI, гьури кIодо – пишагьечI. 37. РагIи гIемерав вакъарав, бугIа гIемерав гIорцIцIарав. 38. РагIи гIемерав «гIакъил» гIадамазда чIалгIуна, чIалгIаде гаргадулев ххалкъалдаго рихуна. 39. РагIи жаниб лъоларессда бицинегIан, квенчIчIел цIун къватIибе байго лълъикIила балъголъиялълъе. 40. РагIи къокъаб лълъикIабила, гIарщ ххалатаб лълъикIабила. 41. РагIи къокъал, къадар ххалатал ратаги. 42. РагIи кьара буго – кьей хIалакъ буго. 43. РагIи кьварараб бице, кьабизе ккани, лIута. 44. РагIи кьогейила, кьуни тIубазабейила. 45. РагIи кьучIчIав чи чодаги лъалев. 46. РагIи лъалев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодов. 47. РагIи лъалев гIабдалассдасса мацIцI лъаларев цIцIодор лълъикIав. 48. РагIи рагIуде бачIуна, гIор кьодукье бачIуна. 49. РагIи – рекIел кIул. 50. РагIи тIагIуна, тIолалго гIадамал хвараб меххалълъ, гIайиб тIагIуна, щивниги тIад кIалъачIого тараб меххалълъ. 51. РагIи ургъун бице, гали борцун тIаме. 52. РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме. 53. РагIи ххалат, ххабар къокъ. 54. РагIи хвани, чи холев. 55. РагIи хварав чи – живго хварав чи. 56. РагIи холев чияссулгун гьудуллъиги гьабуге, холарев реххунги тоге. 57. РагIи-ххочI ххалатассул ххиянат камулареб. 58. РагIи ххалеб хадиро, ххараб цIцIалкIулеб цIцIалкIу (ххараб чIчIикIулеб чIукIна). 59. РагIи хIалакъаб бице, гьан кьарияб кванай. 60. РагIи – ццебессан, тIил – нахъассан. 61. РагIи цIцIалкIулеб цIцIалкIу, цIцIад кколареб буртина. 62. РагIи цIеххоге, хIалтIи цIеххе. 63. РагIи цIцIикIкIиналдасса чIагIа цIцIекIлъиго лълъикIила. 64. РагIи чол багьаяв – живго чахъдал багьаяв. 65. РагIи чIчIедал – гIакъил, кьалда бергьиндал – багьадур. 66. РагIиги кьун, тIубачIого теялдасса, рагIи кьечIого тезе бигьаябила. 67. РагIизе бокьулареб жо рагIулареб. 68. РагIиялълъ гIадан лъала, гIамал бихьун реххссола. 69. РагIуд гIорцIцIиги тIоход вакъиги – цого жо. 70. РагIуд ракъаги, богIод гIорцIцIаги. 71. РагIуда божуге, хIалтIуда божа. 72. РагIуда куркьбал рукIунел (ца таралълъ мегIер толеб). 73. РагIуда ххадуб рагIийила. 74. РагIуда хIатIал гъурай, хIалтIуде нуцIцIа къарай. 75. РагIудаги хIалтIудаги гьоркьоб къол нухила. 76. РагIуе рагIи камулареб, яргъие ярагъ камулареб. 77. РагIукъавщинав гIинкъав вукIунарев. 78. РагIул гугьар гьечIин, гьурал жалго те. 79. РагIул гIомо гьабуге, гIабдалгун щагъадуге. 80. РагIул гIомоялълъул гIарщал гьаруге. 81. РагIул камитал кварасс керен ххачазе ккараб. 82. РагIул квешлъи – ххалалъи, ххарбил квешлъи – гIемерлъи. 83. РагIул кумек боцIцIул кумекалдасса кIудияб. 84. РагIул магIна бичIчIуларесс битIараб гьерессилъун, гьересси битIараблъун гьабулебила. 85. РагIул магIна бичIчIулеб, бакI бихьун. 86. РагIулI лълъикIлъиги букIунебила, гIажалги батулебила. 87. РагIулIе загьру жубаге. 88. РагIухъ ралагьуге, хIалтIухъ ралагье. 89. РагIуцца бахъулареб хъала букIунаребила. 90. РагIуцца гIадан лъала, даруялълъ тоххтир лъала. 91. РагIуцца лIукъулел, рагIуцца сахги гьарулел. 92. РагIуцца рагIи бахъула, чIагIдацца гIуп бахъула. 93. РагIуцца хур беэн гьабуларо, гьури-мучалълъ чIараларо. 94. Радал багIар – къинаб, къасси багIар – хIораб. 95. Радал барщани, къасси рекъолел нилIералго лълъикIила. 96. Радал бицараб къоркъое арай, къасси бицараб борхьие арай. 97. Радал вахъаравги гьитIинго чIчIужу ячаравги нахъа воххулев. 98. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб. Журай къинлъулеб заманалда цо-цо ягъзинав вехьасс, радалго вахъун, жиндирго лемагалда чияр цIцIуяб кьегIер босизабулеб букIун буго, чияралда жиндирго бихьинаб кьегIер босизабулеб букIун буго. Гьединаб хъублъиялда тIад бижараб гьаб кици жакъа хIалтIизабула радал вахъарассул хIалтIи лIугьуна, иш битIун ккола абураб магIнаялда. 99. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб, ццудун вахъарассул сахлъи лълъикIаб. 100. Радал вахъинчIессе къо къваридаб. 101. Радал вахъудасса гIадин къаркъалаги букIунаребила, чи ховудасса гIадин ракIги букIунаребила. 102. Радал вачIарав гьобол ххеххго унев. (Гьаниб гьобол ккола тIабигIат. Умумузул аби буго радал рачIарал накIкIал ххеххго нахъе унилан). 103. Радал кваначIого, къватIивеги вахъунге, къватIул ххарбал росун, рокъовеги вачIунге. 104. Радал къалъизегIан бугони щиб къолол магъало, къалъудасса нахъе бугони щиб росдал кIодолъи. 105. Радал - къалъизегIан къулгъу цIцIалулев, къалъудасса нахъе чагъир гьекъолев. 106. Радал - къалъизегIан къуръан цIцIалулев, къалъудасса нахъе хIамул рикъулев. 107. Радал – къватIиве, къасси – жаниве. 108. Радал – рохьдолIе, къасси – бокьобе. 109. Радал роцIцIун, къалъуда кьерхун. 110. Радал яхъаралълъул балъ тIокIаб. 111. Радалги къассиги квен россассул бугони, къадеквенгIаги чIчIужуялълъулги букIине кколеб. 112. Радалго гьабураб хIалтIи лълъикIаб, гьитIинго ячарай чIчIужу лълъикIай. 113. Радалисса мацIцIицца чанги чи мукIурлъулев, мацIцIида ракI рекъарав бакъ ун ххадусса лъалев. 114. Радалквен дуццаго кванай, къадеквен гьалмагъгун цадахъ кванай, къассиквен тушманассе кье. 115. Ражи мискинчияссул дандежойила. 116. Ражи тIагIиндал тIураб цIцIамулIин гIадав. – Ражи хху - ххун, ххинкIал квин дуццаги те, Ххарабат! – ХхинкIазда гIужал райи дуцаги те, хIалихьат! 117. Ражи цIцIоролеб моцIцIалълъ ЦIцIолода рохьовеги унге, цIцIани къинлъулI мундерил ахакьеги унге. 118. РажидулI анкьго дару букIунеб. 119. Разилъи гьечIого яс ригьнаде кьейги кIудияб мунагьила. 120. Разияб къоялълъ гIурусазул гьатIанкъо гIадав, пашманаб къоялълъ жугьутIазул шаматкъо гIадав (ВитIани – гьатIан, гьетIани – шамат). 121. Рак бараб хуриве Аллагь валагьунев, бечедаб рокъое яс ялагьулей. 122. Рак баралълъуб хIалухъин хIалигIараб букIуна. 123. Рак гьечIого, бокь бичуге, бекьичIого хур бичуге. 124. Рак хIаллъанагIан, хIалухъин гьарзалъулеб, кици гIемерлъанагIан, калам берцинлъулеб. 125. Рак чIвачIеб хуралдассаги цIунагийила, хур гьечIеб рукъалдассаги цIунагийила. 126. Рак чIвачIони, ракьалълъ пайда кьолареб, хъулухъ гьабичIони, ахикь пихъ бижулареб. 127. Раква гьетIунилан, гьобо хисулареб, гьобо бекунилан, раква хисулареб. 128. РакугохI хисунилан хъабхъал чIахIалъиларо. 129. Ракъдадаги вукIун гуребила ччугIа кколеб. 130. Ракъдада лIугьараб хIор ххеххгого къунебила. 131. Ракъи – хьул, кIвахI – ссвак. 132. Ракъугеги, гIорцIцIугеги, рахакь хваги. ПатихIа. 133. Ракъуда нич гьечIеб, бечелъиялълъе гIей гьечIеб. 134. Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани, рагIи гьуинлъула. 135. Ракъул къали кIутIугеги, къохьол тIажу ретIунгеги, чиякълъун чи ххутIугеги. 136. Ракъусоналълъ месед учузаб. 137. Ракъусоналълъ руцIцIун чIчIарал, гIорцIцIунсоналълъ релъанхъарал магIарулал. Ракъусоналълъ, хъабиниб бетIерги къан, годекIаниссан унеб гьойда щивго велъичIевила. Хур бачIараб соналълъ, гьебги ракIалде щун, киналго релъаралила. 138. Ракъусоналълъ эбел якъуцца хварайила, вас, чохьодасса ун, хваравила. 139. Ракь бижилалде, рак бижарабила, гIолохъанчи вижилалде, гьекъолеб жо бижарабила. 140. Ракь бухъани, месед батулебила, рагIи бухъани, гIажал батулебила. ВукIун вуго цо бечедав чи. БукIун буго гьессул кIудияб ахги гIатIидаб пастIан-къоноги. Кидаго гьесс кIиявго васассда абулеб букIун буго - “РакьулI месед бугебхха, дир лъимал, рагIулI гIажал бугеб. Ворехха, нужецца ракь гIемер бухъе, рагIи дагьабги бухъуге!” – ян. Жинцца ракьулI баххчараб щибниги жо гьечIого, инссуцца кидаго нилIеда гьадал рагIаби гIемер абилароанилан ракIалдеги ккун, кIиявго ваццасс ракь гIемер бухъулеб букIун буго. Месед-гIарац жинда-жинда батилародаян, цоцаздасса балъгоги хъирщадулел рукIун руго. КъотIун буго пайдаяб жо батиялдасса хьул. Реххун тун буго ваццаз ракь, ракьалълъ гьалги тун руго. Заманалдассан гьитIинав ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги кIудияв ваццассул хIелеко хъазлъун бихьун буго. КIудияв ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги ккун буго гъозул хъаз варанийилан. КIудияссухъе щун батилин дагьабниги меседилан гьитIинав, гьитIинаб гIонкIкIоцца гуккун ватилин живилан кIудияв, цоцаздеги шакдарун, рагIи бухъизе лIугьун руго. Руччабазги риччан руго рагIул ххалатал раххссал. Инссуцца меседилан ссунде абулеб букIарабали бичIчIичIел лъималазда рагIулI гIажал цIакъго кIудияб батун буго. 141. Ракь кинаб букIаниги, гьелълъ гурони нилI хьихьуларел. 142. Ракьа гьечIеб гьан букIунареб. 143. Ракьа гьечIеб гьанги хIе гьечIеб гьоцIцIоги букIунареб. 144. Ракьалда бихьичIониги, хIарам зобалда бихьулеб. 145. Ракьалдасса бер гIорцIцIулареб, гIарац тIассан чваххулареб. 146. Ракь-ракьалълъул гIадат батIияб, гIадамазул ххассиятги батIияб. 147. Ракьа бугони, гьан камиларо. 148. Ракьа бугониги гIолебила ГIандисса чое. 149. Ракьалдассан рижарал нилI ракьалде тIад руссуна. 150. Ракьалда тIадалдасса ххиянатчияссе ракьул чохьонибго лълъикIила. 151. Ракьул бетIергьан вуго ракь хIалтIизабурав чи. 152. Ракьул гIанкIкI ракьул гьойцца гурони кколареб. 153. РакьулI баххчаниги балагьулебила гьунаралълъ къватIибе нух. 154. РакьулIе ккараб мугь тIирщичIого ххутIулареб. 155. РакьулIе регьел – ракьулIан тIорщел. 156. РакьулIе рехханиги, месед холареб, хабалIе аниги, бахIарчи холарев. 157. Ракьуцца кваназавизе бокьарасс ракьги кваназабе. 158. РакI бахIарлъунилан, черхх цIилъуларо, Чорххол лугбузул гьан гур-гурун ххадуб, Горбол щекI цIцIабуцIцIун, мугъ битIуларо, Мугъзал гьод къулараб къо бачIун ххадуб. 159. РакI бащалъуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, чехь бащалъуларессулгун гьалмагълъиги гьабуге. 160. РакI бакъвани – Закил рукъ, ццим бахъани – Ххизрил рукъ. 161. РакI бащалъун квараб гурга лълъикIабила, мекъсса руссун квараб чадидасса. 162. РакI беццлъиялдасса бер беццлъи лълъикIаб. 163. РакI бечедассул рукъ мискинаб. 164. РакI битIизегIан, мацIцI битIулареб. 165. РакI бихьуларев гьудулассдасса берал рихьулев тущман лълъикIав. 166. РакI гурхIун, асскIобе бачараб бурутI, ццим бахъун, бачахъизе ккарабила. 167. РакI гIедегIарассе нух ххалатаб. 168. РакI квегъиялдасса черхх квегъи бигьаябила. 169. РакI къварилъи – херлъиялълъул бащалъи. 170. РакI кьерхарассе дунялги кьерлъун букIунеб. 171. РакI рагьуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, сапар хIехьолареб хIамагун нухдаги унге. 172. РакI херлъичIогойилан, къаркъала херлъичIого букIунареб. 173. РакI унтун гIодани, беццаб бадиссаги магIу баккулеб. 174. РакI херлъугеги, хоб билугеги. 175. РакI чIчIараб жо – гIайлан чед. 176. РакI щваралълъубе хIетIги щун. 177. РакI щулияссул черххги щулияб, ракI тамахассул черххги тамахаб. 178. РакIал гIатIидалълъуб бакIги гIатIидаб. 179. РакIалда бугеб жо бицинчIогойила нухъа чIчIегIерлъараб. 180. РакIалда бугебщинаб гьурщизе кколареб. 181. РакIалда гьечIеб мугъалда нахъа батугеги. 182. РакIалда къараб къватIибе реххичIого ххутIулареб. 183. РакIалдасса ххеххаб жоги гьечIеб, ххеххго хисулеб жоги гьечIеб. 184. РакIалълъ борце, гIакълуялълъ къотIе. 185. РакIалълъ пикру гьабичIони, канал бераздаги щибниги бихьулареб. 186. РакIалълъ хвел гьарулей, кIалалълъ сахлъи гьарулей. 187. РакIа-рахари гьечIезул къо, къваригIараб жо балагьулаго, унебила. 188. Ралъад гъваридабгIаги, гьелълъулги тIину бугеб, мегIер борххатабгIаги, гьелълъулги бетIер бугеб. 189. Ралъад лълъецца гIорцIцIулареб, боцIцIи гIун, чи холарев. 190. Ралъдадаги гел лъе, гIемер бугилан исрап гьабуге. 191. Ралъдаеги щуб къваригIунеб, щубаеги бакъ къваригIунеб (Ралъдаеги – щуб, щубаеги – бакъ). 192. Ралъдал карачелалда рекIинчIони, гьоцIцIо щоларо. 193. Ралъдал лълъималълъеги пасалъи бегьуларебила. 194. Ралъдал лълъим цIцIикIкIуна тIаде рачIунел гIораздалъун, тIадчияссул лъай цIцIикIкIуна чияцца бицунелълъухъ гIинтIамиялдалъун. 195. Ралъдал тIину гьечIеб, гIорцIмадул тIинчI гьечIеб. 196. РалъдалIе бохх биччан паххрулъарай мун, Ралъад къундай бугеб, мун къулун йигин. Меседил мали чIван зодой яхарай, Молол гIучI бекундай, гIодой чIван йигин. 197. РалъдалIе лълъимги баччуге, рохьобе тIилги босуге. 198. РалъдалIе реххараб рукIкIада ххадувги унге, хварав чияссде гIайибги реххуге. 199. Рас бижанагIанила гIункIкI бугьунеб, бечелъанагIанила чи бараххщулев. 200. Рас ххалалъунилан хханасс мун ячинаро. 201. Рас хIеренаб бихьунила хIанчIицца руз бетIулеб. 202. РатIа – биххаро, бохх – гIуцIцIаро. 203. Рател гьечIеб хIалтIи – меххтулареб чIагIа. 204. РатIалги щоларого, щигатги гIоларого. 205. РатIаялълъ гьоркьоблъи тIезабулеб, боххалълъ гIуцIцIулеб. 206. РатIлид вуцIцIарассул хIурмат кIудияб, тIагъур хIуларассухъ гIин тIамулареб. 207. РатIлие эххетарав тIоххое бегьуларев. 208. РатIлил исбагьилъи – гьарзалъи, чорххол исбагьилъи - ххалалъи. 209. РатIлихъ балагьун – дандчIвай, ххарбихъ балагьун – тIовитIи. 210. РатIлицца чийилан, чухъа ретIарав, чоцца багьадуран, ябу рекIарав. 211. РатIлицца – чи, чоцца – багьадур. 212. Рахакь хIебтIарав хIал ккедал къватIив чIвалев. 213. Рахал рикIкIунев гьечIев чиясс квеш вугилан абуге. 214. Рахараб гъамассги буцIцIараб кIалги – кIиябго бечедаб жо. 215. Рахен гьечIеб гIор букIунареб, нух гьечIеб мегIер букIунареб. 216. Рахен гьечIеб кьуру гьечIеб, рагIал гьечIеб авлахъ гьечIеб. 217. РахъдалI бугониги, чиниги лъала, чурулI бугониги, меседги лъала. 218. Рахь баккулареб гIакдае чури кьоге. 219. Рахь гьечIеб гIакдацца гIартилI мал бала. 220. Рахь гIемер унеб бугилан, гIункIкI къан цIцIурай, гIадада жо теларилан, хвараб гIака бечIчIарай. 221. Рахь кьолареб гIакдае чури кьоге, пайда бахунареб жоялълъе ххарж гьабуге. 222. Рахь хахулелълъул бече хIалакъаб. 223. РахьдалI рас ххеххго бихьулеб. 224. Рахь-нах бокьарасс гIака лълъикI хьихье (ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран). 225. РахIат гьечIеб хIалтIудассаги цIунаги, хIалтIи гьечIеб рахIаталдассаги цIунаги. – РахIат, хIажи, рахIат! – ан абурабила гIарабиясс варани цогидазулалда ххадуб гъезабеян абурав хIеж борххулев магIарулассда. РахIат букIуна дие, дир вараниялълъул бетIер цогидазулалда бащалъараб меххалълъ! – ан жаваб кьурабила магIарулассги. РахIатаб гIумру бокьани, дуццаго чияеги гьабуге налъи, чияда дуегоги гьабуге. РахIатал гьарзалъани, гIакълу гьечIев чIухIула, Балагьал тIаде щвани, ххеххгого къварилъула. 226. РахIаталълъе гIей гьечIеб, рокьуе гIурхъи гьечIеб. 227. РахIаталълъе гIей гьечIебила, боцIцIи гIун, гIаданги хвечIевила. 228. РахIаталълъе гIей гьечIилан, ГIакулицца бусен борлIарабила. 229. РахIатгун – хIалихьалъи, захIматгун – бахIарчилъи. 230. РацIцIалъи гьабулей гурейила яцIцIадай, рацIцIалъи цIунулейила. 231. РацIцIалъи – сахлъиялълъул бетIер, чороклъи – унтул гьудул. 232. РацIцIа-ракъалъи гьабизеялдасса цIунизе лъазе ккола. 233. РацIцIа-ракъалъи гьабулелълъуб гуребила букIунеб, цIунулелълъубила. 234. Рачараз лълъудби хьихьаги, гьарураз лъимал хьихьаги. 235. Рачелалълъ чехь къарав, чоцца гьан къарав. 236. Рачиде баче чаран. 237. Рач-рачаги, а-аги, ирга дидеги щваги. 238. Раччлиде гIи аралълъуссан хIатIида гIицIцIго ине ккаги. 239. Раччи бачче черххалда рекъараб, квен кванай чехьалда рекъараб. 240. РаччулI хIама къинлъугеги, хIалтIулI лълъади къинлъугеги. 241. РачIчI бухьун, хIама чIчIолареб (ХIамил рачIчI бухьун чIчIолареб). 242. РачIчI къотIун, борохь къелIе биччаге. 243. РачIчI кIудияб лIугьинейилан, дегIен хьихьун букIарабила, лIурдул кIудиял лIугьун, чехь бихъизе ккарабила. 244. РачIчI ххалатаб гьойги хьихьуге, гьод ххалатаб чуги босуге. 245. РачIчIалдасса чIухIараб хIелеко гIадин. 246. РачIен гьечIеб рукъ – охх унеб гьобо. 247. Ращалъи гьабунагIан, гьуинлъи (гьудуллъи) цIцIикIкIунеб. 248. Ращалъиялълъул асслу – ритIухълъи. 249. Регьел гIуралълъубе щуб гIолеб. 250. Регьел хIалалъуб чед кIудияб, чи хIалалълъуб хIалтIи кIудияб. 251. Регьелги ххинлъиги гIедалила гIодобе бортараб мугь тIирщалеб. 252. РегIараб меххалълъ гуребила кумек гьабулеб, къваригIараб меххалълъила. 253. РегIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге, херлъараб меххалълъ гьабилилан динги тоге. 254. РегIараб меххалълъ гьабилилан кумекги тоге, щвараб меххалълъ бецIилилан налъиги тоге. 255. «РегIуларо», «щоларо» гIилалъун рикIкIунаро. 256. РегIун гIумру аги, хIехьезе гIакълу кьеги. 257. Рекъав чияссул рагIад къокъаб букIуна. 258. Рекъараб гIамал ккурав гIадамазе вокьула. 259. Рекъараб рехъалълъ хъумур речIчIулареб. 260. Рекъасс къвал цIурабила, къокъасс магь баччарабила. 261. Рекъел бугила масслихIатчагIазул иш, цин ХIаригабурлъи бегейила. Яс уней йиго васассда ххадуй лIутун. Гьезие хIинкъи буго ахIуд бахъун бачIараб ясалълъул гIагарлъиялълъ жал чIваялълъул. Ясалълъ васассда абулеб буго, унго, умумул нилIеда тIассагIаги лIугьинародай, гьел нилIгун рекъезарулев чиго вукIинародайилан. Васасс ясалда абун буго, цин хIинкъи бугеб бакIалдасса рорчIилин, маслихIаталълъе чи камиларев ватилилан. Кициялълъул магIна буго - «Цин хIинкъиялдасса цIуне, ххадуссеб ххадуб гьабе», – ян абураб. 262. РекъечIеб бицарассда бокьулареб рагIулеб, ххвалчадул ругънадасса рагIул ругъун унтулеб. 263. РекъечIелълъуб кIал гъурай, кIваричIелълъуб бер гъурай. 264. Рекъолареб ганчIицца къед ссурукъ гьабула. 265. Рекъон кванай, къецц бан хIалтIе. 266. Рекъон хIалтIаразул хIалтIи гIемераб, рекъон ахIаразул бакъан рекъараб. 267. Рекъон чIчIикIаре. Жибго гьитIинаб «гIамал кIудияб» кIиго рагIиялдассан гIуцIцIараб гьаб кициялълъул гьайбатлъиги берцинлъиги! Вихьизе гьитIинав, гьунар кIудияв чияссде магIарулаз абула тIаде вугевгIанассев ракьулIеги вугев чийилан. НилI жиндасса чIухIизе бегьулеб гьаб кIиго рагIиялълъул кьалбал гъваридал руго. Гьалълъ бицуна цолъиялълъулI гуч букIиналълъулги, росдал газа кьурда рекIиналълъулги, кIиго бетIерги рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ бечелъиялълъул, инсаният рекъон хIалтIанагIан, кинабго рахъ ццебетIеялълъулги, бищунго инсанассе хIажатаб, рекIее рахIат бугеб, хIинкъи гьечIеб гIумруялълъулги. Гьелда тIад бижана - «Рекъон хIалтIанагIан цадахъаб магIишат бечедаб», – ан абураб цIияб кициги. 268. РекIараб чуялда кьурдарав дун, кьолочIеб гIорцIмада рекIарав мун. 269. РекIаралълъув рещтIаги, борчаралълъуб бичаги. 270. РекIарассда лъелав велъуларев. 271. РекIаразул бода гьабизе кIолареб гIакъилассул кIалалда гьабизе кIолеб. 272. РекIарассухъ ралагьун, рекIа, рещтIарассухъ ралагьун, рещтIа. 273. РекIеда балареб гьуриялдасса гьури-бакъ чIвалареб чIчIегIер ракьулI лълъикI! 274. РекIеда бараб хIапаро гIадав чи. 275. РекIеда кIулал рарав, кIалдиб килас кьабурав. 276. РекIеда тIатIи рекIарав мун, тIулида нацIцI барав дун. 277. РекIеда тIатIи рекIарав хIариколоссессда хIатIикь цIа бакарав кIахъияв вичIчIиларо. 278. РекIедасса рекIеде – кьо. 279. РекIее бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколев. 280. РекIее бокьараб жо – чорххое мархIам. 281. РекIел бер балагьичIони, бералда канлъи бихьулареб. 282. РекIел бечелъиялда боцIцIул бечелъи бащалъуларебила. 283. РекIел гIадлу биххугеги, чорххол гIамал хисугеги. 284. РекIел гIин гIенеккичIони, гIиналда рагIи рагIулареб. 285. РекIел къварилъиялълъ гьакълиде цIцIалел, дагIба-къеццалълъ кьалде ахIулел. 286. РекIел пашманлъи хъамулеб гьури – хIалтIи. 287. РекIел хIуби – чехь, чохьол хIуби – чед. 288. РекIелI бугеб лъалареб, лъороб бугеб бихьулареб. 289. РекIелI бугеб меххалълъ нилI балъголъиялълъул хханзабийила, цабзаздасса борчIани, нилI гьелълъул лагъзалила. 290. РекIелI бугеб хъублъи гьурмадаги бихьулебила. 291. РекIелI цоги ккун, кIалалълъ батIияб бицунге. 292. РекIелI цIунараб цо хIарп лълъикIабила кагътида цIунараб нусго рагIиялдасса. 293. РекIелI чаран бугессе чинаридул тIилги тIассан ккараб ярагъила. 294. РекIелIа рокьи кIалдисса гIус гIадин бахъуларо. 295. РекIелIан бачIараб рагIи гурони, рекIелIе унареб. 296. РекIиндал Аллагь кIочон тарав, рещтIиндал чу кIочон тарав. 297. РекIиндал чу лъалеб, вилълъиндал рекъав лъалев. 298. РекIине лъараб гIадин, рекIараб чол квелълъ кквезеги лъа. 299. РекIинеги лъа, рещтIинеги лъа. 300. РекIинчIого чу лъалареб, чиякълъичIого чи лъаларев. 301. РекIун бихьун, чу босе, лъун бихьун, кьили босе. 302. РелъанагIан гIодизе кколел. 303. Релъедал макьилI щиб бихьулареб, вокьуларев чиясс щиб бицунареб? 304. Релъи букIунебила бачIарабги бачIине гьабурабги. 305. Релъи гIемералълъуб талихI гIемераб. 306. Релълъаразда релълъаралила росс-лълъади данде чIвалел. 307. Релълъаралда релълъарабила ратIлида рукъи балеб. 308. Релълъаралда релълъарабила рохьдолI хIайванги данделъулеб. 309. «Рес бугезул гъáлалълъ», – ан гьагай бикаялълъ месед гъалазда гьоркьоб хьухьун букIарабила. 310. Рес гьечIеб сон - савуд бухIараб дуниял. 311. Рес къотIидал вагъуларев чи вукIунарев, ручнибе тIамидал багъулареб гьой букIунареб. 312. Рес къотIидал хIинкъаравги къвакIулев. 313. Рес мекъаб гъветI камураб рохь букIунареб, гIабдал камураб росу букIунареб. 314. Рес рекъаравгIан чи – къарумав, мискинавгIан чи – саххаватав. 315. Рес щибила Чакарил, мочол хурий ятидал. 316. Ресги бугони, резги бугони, хъарбекIалда горал тIамизе бигьаяб жойила. 317. РетIел инжит гьабуни, ратIликълъиги бихьулеб, чед инжит гьабуни, чадикълъиги бихьулеб. 318. РетIел къадараб букIа абе, къамартIго чIчIа, мискинчи. 319. РетIел бихьун, къабул гьарулел, гIакълу бихьун, тIоритIулел. 320. РетIел бихьун – чи, чу бихьун – бахIарчи. 321. РетIел тIутIурассде гьабиги рортулел, тIагъур хIуларассда тIохIокги велъулев. 322. РетIел ххашав чияссде ххеххго рагIи реххуге, хъабчилI багьадур ватун, рекIекълизе бегьула. 323. РетIел цIидалъго цIуне, намус гьитIинго цIуне. 324. РетIел цIияб лълъикIаб, гьудул басрияв лълъикIав. 325. РетIине гурони къоги бачIинчIо, къойил ретIун хвараб дарайдул гурде! 326. РетIине камугеги, кваназе тIагIунгеги. 327. РетIине лъаларессе читери кьурав Аллагь, Чуризе лъаларессе мандари кьурав Аллагь. 328. Рехханщинаб чIор гIужда щолареб. 329. Реххаралълъуб тIенкел, тIамуралълъуб турут гIадин. 330. Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб бечелъи. Ххунздерил хханассулги гьидалъессулги бечелъи сабаблъун дагIба-къецц кканила. Жив бечедав вугилан ххан, гурила, жив бечедав вугилан гьидалIев чIчIанила. АхIанила хханасс гьидалIев Ххунзахъе, бихьанила гьессда жиндирго бугебщинаб гIарац-меседги гIарац-меседалълъул гьабураб къайиги. Жойидего гьабичIила гьидалIес гьеб бечелъи. Анила ххан ГьидалIе гьидалIессулги бечелъи бихьизе. ЦохIого цо цагъурги ссанкIалги цIураб ролI бугила гьессул, я гIарац гурила, я месед гурила. ГьидалIессул бечелъиялде бер-ракIго щвечIого, нахъ вуссанила ххунздерил хханги. Анила цо сон, анила кIиго сон, бачIанила Ххунзахъ тIалъиялдаго цIакъ хурукъаб сон. Хханасс, месед-гIарацги босун, гьакалги рачун, жиндирго гIадамал ритIанила ГьидалIе, ролI босизе. ГьидалIес, щибго жоги абичIого, хханассул месед-гIарац чури тIолеб росонибе банила, тIаде гьойги биччанила. Гьелълъ, чуриги чIчIикIун, месед-гIарац, цо мискъал камичIого, росол тIиналда ххутIанила. «Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб нужерго месед-гIарац нахъе босе», – ян абунила гьидалIесс. РачIарал гьакал цIун, ролIги битIанила ххунздерил хханассе. Гьанже бичIчIанила хханассда гьидалIесс живго щай бечедавлъун рикIкIуневали. 331. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила Мала Нассрудиницца, вараниялда куркьбал рижун ратичIелълъул. 332. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила хIамицца, чIчIужугIаданлъун бижун батичIелълъул. 333. Рецц бокьуларев ххан вукIунаревила, ххарж бокьуларев нукар вукIунаревила. 334. Рецц бокьуларев чи къанагIатав, ришват босуларев хIаким дагьав. 335. Рецц гьабун гаргадиялълъ бецц гьарула, гIунгутIаби рициналълъ кантIизарула. 336. Реццалълъ бецц гьавизе вукIунгейила. 337. Реццалълъ гуревила чи гьавулев. Иццухъ дандчIванила лъабго чIчIужугIадан. ТIоццеессей лIугьанила хIаталдасса ун жиндирго вас веццизе. “Дир гIадав малълъарабги гьабулев, гьикъарабги бицунев вас росулIго гьечIо. Лълъицца киве витIаниги, инкар гьабичIого, уна, щиб тIад къаниги, тIубазабула”, – ян абунила гьелълъ. КIиабилелълъги байбихьанила жиндирго вас веццизе. “Валагь, дирги вуго цIакъав вас. ЧIахIиязул адабги гьабула гьесс, гIиссиназул хъатирги гьабула. Цо лълъиениги кумек гьабизе щвани, тIокIаб щибниги къваригIунаро дир дарманассе. Щиб гьабизе дун лIугьаниги, ццеве-ццеве кIанцIун, гьабула”, – ян бицанила гьелълъги. Лъабабилей, гьезухъги гIенеккун, юцIцIун чIчIанила. Гьеб кинабго рагIанила цо херассда. Гьессда ракIалде кканила гьей лъабабилей гIаданалълъул лъимерго батиларилан. Батаниги, гьеб батилин кIкIвахIалаб, хIалтIи рихараб, эбел-инссул адаб гьечIеб рижи. Руччабаз гIертIалги хъубиги лълъел цIунила. Цинги, гъажалда гIертIалги ран, кодор хъубиги ккун, годекIан къотIун, унел рукIанила. Гьенив ганчIида гIодов чIчIун вукIарав цо гьитIинав вас дой щибго жо абичIей гIаданалда асскIове векерун анила. “Дихъе кье, баба”, – янги абун, гьелълъухъа хъаба босанила. Реццарулел рукIарал руччабазул добго ганчIида гIодор чIчIун рукIарал лъималин абуни тIадецин рахъинчIила. Гьеб кинабго бихьарав херасс, бетIерги кIибикIун, абунила - “Реццалълъ гIадан гьавуларо, гIамалалълъ гурони”. 338. РечIчIани, къелIе унев, къани, хIоболIе унев. 339. РечIчIулев-речIчIулев вукIа, цояб щвечIони, цогияб щолеб. 340. Рещалъараб меххалълъ моцIцI тIасса бекула, барщараб меххалълъ бетIичIеб пихъ бортула. 341. РещтIине лъаларев рекIинавуге. 342. РещтIине чIеп гуреб, чIчIезе мокъ гуреб, билълъая, бачинин мунго бичизе. 343. Ригь чIухIарав гуревила бечедав, хур чIухIаравила. 344. Ригьда рега, ригьда рахъа, рузил гIамал жибго те. 345. Ригьин гуро бацIилги гьойдулги гIадаб рекъел, гьудуллъи гуро царалги нухлулассулги гIадаб божилъи. 346. Ригьин – реццалълъул, даран – рекIкIалълъул. 347. Ригьин чияргун лълъикIаб, чи нилIерго лълъикIав (ригьин чияргун гьабе, чи нилIерго ккве). 348. Ригьинги ригьги ургъун гьабе. 349. Ригьнадасса воххарав кидаго берталълъ вуго, ригьин-цIа бигъаразе даимаб гIазаб буго. 350. Ригьнисса гьурал унеб, гьоросса гурцIал унеб (ххасел бащалъиялълъул гIаламатал). 351. Риди гьаризе унесс хъаба баххчулеб. 352. Риди дарулъи лъалебани, нахъияссе щвелароанила. 353. Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман. 354. Рии аги, бугIа гIезе, ххасел аги, рагIи гIезе. 355. Рии кьарияб, кьин хIалакъаб. 356. Рии кьижун арассе ихдал мискинлъиялълъ макьу толареб. 357. Рии нахулаб бачIаги, ххасел бечедаб бачIаги. 358. Рии чIчIедал, хур бекьарав, ххасел чIчIедал, ххер бецарав. 359. Риида – тIингъилI, ххасало – чухъилI. 360. Риидал бакънал рачуней йикIарай ххасало кьурдулей йикIа. 361. Риидал бакъуд мугъ бухIичIони, ххасало чIагIдад чехь бухIуларо. 362. Риидал борохь бихьарав ххасало гIарщикьа хIинкъулевила. 363. Риидал гьарурал ганчIал кьеян абулебила ххасало гIачияз. 364. Риидал гьекичIони, ххасало гьунщуларел. 365. Риидал гIадалнах гьаличIони, ххасало хьаг гьалуларо. 366. Риидал гIодобе бегьараб квер чIобого бачIунареб. 367. Риидал гьабичIеб ххасало батулареб. 368. Риидал жиндие гIоло чIваян абулебила чоцца тIукъби, ххасало нужеего гIоло чIвайила. 369. Риидал кьижани, кьиндал гIака холеб. 370. Риидал кьижарай Кьара ГIашура, Кьиндал гIака холеб рагIичIищ дуда? 371. Риидал риди гьекъе, ххасало нах кванай. 372. Риидал тIимугъ босе, ххасало буртина босе. 373. Риидал – Ххалунчакар, ххасало – Гвангвачакар. 374. Риидал херабги босуге, ххасало хIалакъабги босуге. 375. Риидал хур бекье, ххасало кор баке. 376. Риидал хурив хва, ххасало рокъов хва. 377. Риидал хIалтIарав кьиндал кванала. 378. Риидал черхх берцин гьабула узданаб ретIелалълъ, ххасало – ххинаб ретIелалълъ. 379. Риидал чIарадичIони, ххасало гьороб жо букIунареб. 380. Риидала – Ххассбика, ххасало – къватIулбика. 381. Риидалил цого хур, ххасало гIазукь къараб, Ххасалил цого ссугъур, боххиссан ххер баккараб. 382. Рии-риидал – чIор-чIорол, ххаса-ххасало – гуд-гудучI. 383. Рикьи балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе къали чIехьолареб). 384. Рикьул гьарурал ххинкIал ригьда кунев алазан. 385. РикIкIада бугеб гIагарлъиялдасса асскIов вугев мадугьалго лълъикIила. 386. РикIкIада месед бугилан рагIани, асскIоре щвейдал пахь батулеб. 387. РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула, хун рагIилалде, рукъун ратула. 388. РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардасса квараб ссахI лълъикIаб. 389. РикIкIадассан йихьизе лълъикIай чияр яс асскIоре щун йихьизе жо гурей жо ятула. НекIо гIемериссел магIарул росабалI гIадат букIана абурай яс жиндирго абурассда йихьизе чIчIолареб. Тоххлъукье данде чIван, вас кIалъаниги, яс кIалъалароан. Чанги ячунаан бер чIван йихьичIейги. Гьелълъул хIассилалда гьадаб кициялълъ бицунеб жоги гIемер кколаан. РикIкIадассан гурони чияда рихьуларел бечедал чагIазул жанир тун цIунарал цо-цо ясал канлъукъал, рагIукъал ратулаан. 390. РикIкIаде боржараб гIумру къокъаб цIцIум. 391. РитIухълъи ххвалчадассаги рекIараб. 392. РитIухълъи цIунизелъун рухIалдаги бараххщуге. 393. РитIаралщинал рагIаби берцинал рукIунарел, берциналщинал рагIаби гьерессиялги рукIунарел. 394. РитIухълъи гъоркье, тIекълъи тIаде ккараб заманги букIунебила (Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман). 395. РитIухълъиялде нух ххалатаб. 396. РитIухълъиялълъе диван хIажалъуларо. 397. РитIухълъиялълъул нух гIатIидаб. 398. Рихараб ххоххоцца ххер гIемер кваналеб. 399. Рихханжоялълъул жо гIолареб, гургил чед лIугьунареб. 400. «Рихьдае Бичассул чагIилъун хIараз, Сунатабги гьабун, гьоркьоб тола парз». 401. Риццатазе – тIорахь, тIереназе – риди. 402. РицIцIил тIилада тIорччол бер гъурав вугониги, чоххтIо-чIинчIуялдаса къадараб тIагъур букIунареб. 403. Ришват босуларев хIаким дагьав, хIарам гьабуларев даранчи дагьав. 404. Рододасса нах буххарав, хвараб хIамидасса тIукъби рахъарав. 405. Рокъоб бугеб – къватIул лълъим, кватIиб бугеб – гьацIцIул лълъим. 406. Рокъоб гамачI къулчIчIизе кканиги, къватIиб лъазе тогейила. 407. Рокъоб гьой – къватIибги гьой, рокъоб бацI – къватIибги бацI. 408. Рокъоб как баларев Гогол ГIалицца, гамаялде вахун, жамагIат бана. Кицилъун лIугьарал гьал рагIабаз бицунеб буго ххалкъалда гьоркьор рукIарал жидеццаго какцин баларел, жамагIаталълъе динияб ццебехъанлъи гьабулел рукIарал гIадамазул. 409. Рокъоб къадру гьечIессул къватIибги букIунареб. 410. Рокъоб къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб. 411. Рокъоб къир-къир бугони, дуниял къварилъула. 412. Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIасселълъ. 413. Рокъоб ххам бугони, ххалатаб гурде, ххараб жо бугони, чIахIиял ххинкIал. 414. Рокъоб чед бугессда чияр мацIцI лъаларо. 415. Рокъобго къулгIаги тун, къватIисса лълъим баччарай. 416. Рокъобе нух кидаго гIагараб. 417. Рокъов вукIун, хур босулеб, хурив вукIун, рукъ босулареб (хIажатаб ццебе босе, цогидаб ххадуб босе). 418. Рокъов гъалбацI – къватIив гIанкIкI. 419. Рокъов – дегIен, къватIив - цIцIе. 420. Рокъов цIцIогьор хваги, ЦIцIоров дибир хваги. 421. Рокъой йигеб меххалълъ инссул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ. Кициялълъ бицунеб буго, россассе кьурай яс тIад юссун ячIараб меххалълъ, гьелълъул къадру холилан, хъизаналълъе гьей йокьуларилан. 422. Рокъой йигей лълъадул «лълъикIлъи» батила, лълъимцин хъван гьечIо дур шарбалалда. 423. Рокъой лълъади йокьун, къватIий дун йокьун, Къвалакь гьудул йокьун, берал дий къвакун. 424. Рокъой чIчIужу – бакъги моцIцIги. 425. Рокьаразул такъсир – гьитIинаб мунагь, рихаразул ххатIа – кIудияб мунагь. 426. Рокьи басандичIони, хIалтIул хIур бахъунареб. 427. Рокьи бергьараб жо ккола, эбел-эменни рази гьариги инсанассул борч ккола. 428. Рокьи бикъарав цIцIогьор кколаро. 429. Рокьи бищунго ццидалаб цидулги кколебила. 430. Рокьи гьабизеги вас къваригIунев, Ярагъги борчарав, чуги рекIарав. Балай гьабизеги яс къваригIуней, ГIалххул чундузда гъорлI ритIучI гIадинай. 431. Рокьи гьечIеб черхх – чед гьечIеб таргьа. 432. Рокьи гьечIеб рекIелI ццин букIунаро. 433. Рокьи ккани, кочIохъан яхъуна, чехь бухIани, магIихъан яхъуна. 434. Рокьи ккаразе бусен носол балалдаги гIолебила. 435. Рокьи ккаразе нохъоги – кIалгIа. 436. Рокьи ккарай яс кьералълъ бицуна. 437. Рокьи ккечIей гIаданалда, росода нахъа чIчIун, квен гьабизе лъаларебила. 438. Рокьи ккечIого гьабураб ригьин – гьодораб. 439. Рокьи кьерилI букIунеб. 440. Рокьи, кьолбода гьикъун, гьабулареб, кьал, годекIаниб гьурщун, гьабулареб. 441. Рокьи лълъилго кколеб – рокьуе къвал къазе чи къваригIунев. Балай лълъилго бергьунеб – балай хIехьезеги вас къваригIунев. 442. Рокьи хIарамаб гьечIо, цохIоялълъухъ бугони. Гьекъел хIарамаб гьечIо, гьекъезе лъан, гьекъани. 443. Рокьи – цо, рещтIунеб бакI – кIиго. 444. Рокьиялда гьоркьоб кьалги букIунеб, Балаялда гьоркьоб кьогIлъиги кколеб. 445. Рокьое баге, гьанае бай. Кициялълъул магIна буго хIайваналълъе рагIи-ххер, гьелда гьан букIаго, кьара букIаго, бай, рокьоде ккун ххадуб хIайван кьара гьабизе захIмалъулилан абураб. 446. Рокьуе берцинлъи къваригIунареб, макьие къаданижо къваригIунареб. 446. Рокьуе малълъарухъан хIажалъуларевила. 447. Рокьул рачел къазе чи къваригIуна, Балагьи хIехьезе яхI къваригIуна. 448. Рокьул ццебехъан – маххссара, кьалул ццебехъан – квекIен, кьерхадул ццебехъан – гьури. 449. Рокьуцца ракьа биунеб, балаялълъ берзул нур унеб. 450. РолI бекьарас ролI лъилъулеб, муч бекьарасс муч лъилъулеб. 451. РолIуда гъорлI сусур гIадин вукIунгейила. 452. РолIул хурир ганщалги тун, ссанда ругел бачазе гIадлу гьабулел. 453. Роол къо ххасалил анкьида бащалъулебила. 454. Роол рукъ – буртина, рукъалълъул хΙуби – лълъади. 455. Роржунел жалазда гъорлI чIчIегIераб лачен гIадав. 456. Росс вокьуларей чIчIужуялда гирун бачIунеб гьорчоги гьессул гIайибалдалъун бачIунеб бугилан кколебила. 457. Росс гьавулейги – чIчIужу, росс чIвалейги – чIчIужу. 458. Росс гьечIей чIчIужу – къед биххараб рукъ. 459. Росс какулаго, рукъ кварай, гIака какулаго, нах кварай. 460. Росс квешлъани, лълъадуцца чияхъ рокьи гьабула. 461. Росс кIодо гьавулейги – чIчIужу, чIахIилIе реххулейги – чIчIужу. 462. Росс лълъикIай чIчIужу – лълъикIай, руссун лълъикIаб чу – лълъикIаб. 463. Росс реххулеб кIкIалги – лълъади, росс вахунеб щобги – лълъади. 464. Росс рихаралълъ абулебила жинда росс щакдарулилан, цIцIали рихарасс абулебила жив дибирассе вокьуларилан. 465. Росс хер гьавулейги – чIчIужу, бахIар гьавулейги – чIчIужу. ДахIаххенеро гIадин, гьабил рогIороялълъул бетIералда ххенолеб букIанила цо багIаргIеч. ХIалалав гьабигьан, гьелълъул бетIергьанчи цIеххезе, гьабирахъ чIван эххеде анила. Бищун ццебе батараб ахил бетIергьан – хъахIаб мегежалълъул херав чиясс абунила гIеч жиндир гурин, тIадеххун вугев кIудияв ваццассул батизе бегьулилан. ВитIулаго-витIулаго, гьабигьан тIаде кканила чIчIегIераб михъ-мегежалълъул гIолохъанчи – бищун кIудияв ваццассде. ГIечги гьессул ахикьа бортараб батанила. Гьабигьанасс цIакъ тамаша гьабулеб букIанила ваццазул гIумруялда. КигIан викIараниги, кодобе щвараб жоги букIинчIила. КIудияв ваццасс гьабигьан гьоболлъи гьабизе рокъове вачанила. ЧIчIужуялдаги абунила жидее цо лълъикIаб хъарпуз босун ячIайилан. БачIанила хъарпуз, россассни гьей, дагьабги лълъикIаб босун ячIа, дагьабги лълъикIаб босун ячIаян, лъабцIцIулго нахъюссинаюнила. Цинги, гьаб лълъикIаб бугилан ункъабилеб хъарпузги къотIун, гьабигьанассда гьадин бицанила. Хъарпуз жидер рокъоб цо гурони букIинчIила. ЧанцIцIул нахъ юссинаюниги, чIчIужуялълъ жиндир рагIи хвезабичIила. Гьединай чIчIужу йикIиналълъ жив херлъичIила. Руччабазул ссанагIат гьечIолъиялълъ, ххассго бищун гьитIинав ваццассул лълъадул квешлъиялълъ, жиндир гьитIинал ваццал гьагъадин херлъанила. 466. Россал ругез рокъоб бицунеб, къоролзабаз корохъ бицунеб. 467. Россасс гIатIада хIуччал хъвай – чIчIужуялълъул гIайиб, якьадалълъ царгъида кIулал рай – нусалълъул гIайиб. 468. Россасс лълъади хьихье, лълъецца гьобо ххене. 469. Россасс цIияй чIчIужу ячараб сордоялълъ, хварай чIчIужуялълъул бетIер горбодасса батIалъулебила. 470. Россассда лълъади лъабго къоялълъ юхIулейила, лълъадуда росс лъабго моцIцIалълъ вухIулевила. 471. Россассда рекъарабила лълъадул кIаз букIунеб. 472. Россассда ццим бахъани, чIчIужуялълъ лъимал руххулел, россассул ццим бахъани, чIчIужу юххулей. 473. Россассе индал – хIанкIич, хIорго йикIиндал – мокъокъ. 474. Россассе инегIан – эбел-инссул рукъ, тIад юссун ячIиндал – тушманасул рукъ. 475. Россассе инчIей яс ятагийин, чIчIужу ячинчIев вас ватагийилан гьарулебила гьардухъанасс. 476. Россассе инчIого, гIабдал лъаларей. 477. Россассе кьезе дир яс гIураб меххалълъищин хъалин кьолеб гIадат хвезабулебан абурабила гIандисселълъ. 478. Россассе уней ясалда эбелалълъ малълъарабила - «Дозул доба хъахIалда чIчIегIерабилан абулеб батани, дуццаги гьедин абе, дир яс, чIчIегIералда хъахIабилан абулеб батани, гьединги абе». 479. Россассеги ина, васги гьавила, вацц кисса вахъилев? 480. Россассул къадру-къимат лълъадудассан букIунеб. 481. Россассул рекIелI бугеб жо чIчIужуялълъул кIалдиб букIунеб. Цо ххан вукIаравила кидаго къватIиве вахъунарев «рокъов къурущ». Гьесс къоял инарулел рукIаралила, хъутIахIелеко гIадин, цоялгун вагъун, цоялгун семун, руччабазда гъорлI. Гьессие улка-ракьалълъул ургъелги букIинчIила. Улкаялълъул балъголъабиги, вазирзабазда лъалалдего, руччабазда лъалел рукIаралила. Мадугьалассул чучлъи бихьарав цоги хханасс гьессда лъазабурабила - «Бокьани, рагъде вахъа, бокьичIони, дие пуланал росаби кье!» – ян. Хханасс гьеб балъголъи бищунго йокьулей чIчIужуялда бицарабила, гьелълъги киналго руччабазда гIинчIарабила. Чара хварав ххан цо къоялълъ къватIиве вахъаравила. Къадал ракьандеги ракIарун, гьал гIиссинлъималаз бицунеб жого щибдаян гIенекканила. Бугила гьез бицунеб, мадугьалихъ вугев хханасс нилIер хханассда рагъ лъазабун рагIулила. Вагъизе къуватги гьечIого, чара хун нилIер хханги рагIулила. Гьеб меххалълъ кантIаравила ххан жиндирго гъалатIаздеги ххалкъияб кици битIараб букIиналдеги. 482. Россассулал – лълъадаре, лълъадулал – кIалалълъе. 483. Россги вугей къоролай. 484. Россги вукIуна, росдал гьабзацца квадги вукIуна, чIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна. 485. Россги ГIумаххан вугелълъул, мунгоги Бахху-бикайиланищ ккараб? 486. Росдае гIоло бицараб рагIи – росдае гIоло гьабураб хъулухъ. 487. Росдае ххиянат гьабурав росдал цIецца вухIаги. 488. Росдал анцIилI, бол нусилI. 489. Росдал газа кьурдаги рекIунеб. 490. Росдал гIадат хвеялдасса гIадатаб росу хвей лълъикIаб. 491. Росдал ххабар гIабдалассда гьикъе, рукъалълъул ххабар лъималазда гьикъе. 492. Росдацца хIукму кьуни, хIарпиеги бутIа кьезе кколеб. 493. Росс-лълъади мугъалисса руссараб рукъ – руссунареб сибиралълъул гвенд. 494. Росс-лълъади цолъичIони, рукъ беххе балагьула, рокъоб къир-къир цIцIикIкIани, дунялго къварилъула. 495. Росс-лълъади цоцазда лълъикI лъала, цоял унтараб меххалълъ. 496. Росс-лълъадиялда гьоркьове лIугьарав - гIабдал, гьорода бадиве кIурщарав – ахIмакъ. 497. Росс-лълъадиялълъул гьоркьоблъи лъала, росс жиндирго гурдеялда рукъи базе лIугьараб меххалълъ. 498. Росс-рукъ авадан гьаби лълъадул гьунар-цIцIар буго. 499. Россол рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 500. Росу балагьун, къватIив чIвагеги, къватI балагьун, басралъугеги. 501. Росу бахъун, кьурарай, кьибил бахъун, дургъарай. 502. Росу батIиялълъухъ рокьи ккогеги, Кьибил батIияйгун къадар хъвагеги. 503. Росу бихьун, си борххатаб бай. 504. Росу кIодо, ясал гIемер. 505. Росу лIугьун, къачIарав, кьибил лIугьун, вессарав. 506. Росу рикIкIун – гIадат, гIадан рикIкIун – ххассият. 507. Росу тани, росдаццаги толев. 508. Росу тун арав хвезе росулIе вачIунев. 509. Росу – цо рахъалда, Гьимат – цо рахъалда. 510. Росуго рекъараб кьал букIунареб, кьибилго рекъараб ригьин букIунареб. 511. Росугун дагIбадани, чиякълъула, чIчIужугун дагIбадани, кваникълъула. 512. РосулI гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве. 513. РосулIе унти я базарганассул гьирицца бачIунеб, я гьардохъанассул къвачIицца бачIунеб. 514. РосулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. 515. Роххел гIемералълъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералълъур магIихъаби рахъунел. 516. Рохол багьа къого гъурущ. Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби абун руго базаралда рахи бичулев вукIарав цо магIаруласс. Цо рохохъ къого гъурущ аби гIад гьабун буго рахи босулесс. 517. Рохоцца гIабдалги, гIакъилги, квешалги, лълъикIалги гIадамал жанире рачуна. Гьелдеги учуз буго гьаб, – ан жаваб кьун буго рахи бичулесс. 518. Рохъдол чед гьабурай, чияр чи веэдарай. 519. Рохьалълъ тала босичIого толаро. 520. РохьдолI букIунареб чIухIухъаналде ЧIалгIараб салам дир махил тIилалълъул! 521. РохьдолI тIохIок камулареб. 522. РохьдолI чIчIа, рохьдолI хва. 523. РохьдолI чIчIолареб хIайваналда тIил щола. 524. Рохьил хIайван рохьоб гурони чIчIоларо. 525. Рохьоб гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила. 526. Рохьоб хьараб хьодул пайда щибила. 527. Рохьоб цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ. 528. Рохьоб циги ххутIугеги, цого тIинчIалда божун. 529. Рохьоб чан камулареб, чорххолI унти камулареб. 530. Рохьобго гьечIеб талма, талмикьго гьечIеб гIанкIкI. 531. Рохьобе гIащтIийила, гIалххуде таргьайила. 532. Рохьобе кватIи гурони, гьаб пишаялълъул пайда гьечIилан абурабила гъадицца. 533. Рохьобе тΙил босуге, ралъдалIе лълъимги тIоге. 534. Рохьобе тIил босуге, тIилицца хур бекьуге. 535. Рохьовги вукIун, чIахIида цIа бакарав. 536. Рохьор гъутIбиги ращадал рукIунарелила. 537. Рохьосса вуссунаго, лъабоххида вачIа, дадал. 538. Роццалда рекъарабила рукъи букIунеб. 539. РоццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларебила. ВукIаравила кIиго гьудул. ЙикIарайила гьев кIияссего йокьулей цо ясги. Ясалълъги тIасса вищаравила жиндирго ракIалълъ восарав. Гьарунила гьезие лъималги, букIанила лълъикIабго магIишатги. Гьаб дунялалда лIугьунаребги кколаребги жо щибилахха букIунареб, ракIалдаго гьечIого, сапаралълъ цадахъ кканила дов кIиявго гьудул. Бихьуда росу-ракь гьечIеб цо авлахъалдассан унел рукIанила гьел. Дов ясалълъ тIасса вищичIесс, бахъун чвантинисса таманчагун, гьавцояссда абунила жинцца гьаб бакIалда мун чIвалилан. Цин гьудулассда кканила гьаб маххссара батилилан. Ххадуб, гьессда ракIалда бугеб жо маххссара гуреблъиги щай живго чIвазехъин вугевалиги бичIчIидал, гьасс абунила - - Дир хъизаналълъ доб меххалълъ, дун тIасса вищичIого, мун вищун вукIаравани, дида гьеб хIалихьатаб жо ракIалде ккелароан. Гьеб такъсир гьабуни, дирги дир хъизан-лъималазул гуребги, дуцца чIвазе буго дурго гIумруги… - Дирго гIумру дицца кин чIвалеб? Вихьулеб-рагIулеб бакIалда, инсанали щай гурин, хIайвангицин гьечIо. Лълъида лъалеб мун лълъицца чIваравали? Дицца мун цо хъитIнивеги реххила, тIаде ракьги хъвала – абадиялълъ мун вугеб бакIги лълъиданиги лъаларо! - РоццгьечIалълъ бищунги, гьаб дунялалда щибго балъго ххутIуларилан абула. Бачунге дуцца дудего тIаде гьеб балагь… Гьалмагъассул гьел рагIабазда тIадги велъун, хIалихьатицца гьессда таманча речIчIанила. Анила гьелдасса нахъе чанго сонги, ячанила дов хъурумсахъицца чIварассул йикIарай лълъадилъунги. Цо къоялълъ рагъида гIодов чIчIун россги вукIанила, гIисси-бикъинаб хIалтIуде юссун лълъадиги йикIанила. Дагьа-макъаб гьури бугеб къо букIанила гьеб. Киссан бачIарабали лъачIого, гьороцца босун бачIун, гьезул рагъида рещтIанила роццгьечI. Гьелълъухъги валагьун, росс велъанхъанила. Ссундайин мун велъарав, щибин дуда бихьарабан гьикъанила чIчIужуялълъ. Щибниги бихьичIин, ссунданиги велъичIилан чIчIанила росс. Валлагьин, жого бихьичIого, чи велъуларин, мун жинда велъанилан чIчIанила чIчIужу. Асс абунила, алълъ къотIанила, алълъ абунила, асс къотIанила, аххирги гьаб къецц квешаб рахъалде ссверанила. ЧIчIужу чIчIанила, гьабсагIат ссунда мун велъаравали бицинчIони, жий ячIарабго нухалълъ инссул рокъое инилан. Дуе квешезе бицинилан, гьассги жинццаго гьелълъул росс чIваялълъулги, гьелда ццебе ккараб ххабаралълъулги, “роццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларилан” гьесс абидал, живго велъиялълъулги бицанила. Гьалейин, гьаб роццгьечI бихьидал, кинабгоги ракIалде щун, велъанилан абунила. ЧIчIужу, гьабулеб хIалтIиги жибго тун, рокъожание анила. Гьенибго лъалинисса хханжарги бахъун, гIодов чIчIарав россассда асскIое ячIанила. Гьелейинхха, битIараб букIун бугин жиндир россасс абураб жойилан, хъубухъун босун къазабунила гьессул чохьолI хханжар. Цинги, жинццаго гьабураб жо бицине, росдал бегавулассухъеги ячIарайила. 540. Роцц унтичIого, хоно букIунареб (роцц унтичIого, гIанкIуялълъ хоноги гьабулареб). 541. Роццадасса цIцIикIкIун, чуги кIанцIуларо. 542. Роцен гьечIеб гIемераб квеналдасса цо роццада кунеб дагьаб квен лълъикIаб. 543. Роцен гьечIеб тIехх хханассул тепсиялдаги букIунареб. 544. РоцIцIагиян цIцIани, цIцIад багиян буртIал. 545. РоцIцIараб зодиссан цIцIер балев Аллагь. 546. РоцIцIараб къоялълъ цIцIаназде цIцIаладерил ясалги унел. 547. Роччухъе дунялги букIунаребила, вачIухъе гьоболги вукIунаревила. 548. Ругезда гьечIеланищан, гьечIезда ругеланищан ккарал жалила лъимал. 549. Ругел-гьечIел лъаларел щайтIабакьа щайила хIинкъулел, гьал къойил рихьулел щайтIаби-гIадамакьа щайила хIинкъуларел. 550. РугънатIе цIцIам щвалареб. 551. Ругъун лъечIого, би бецIцIулареб, цIцIад бачIого, тIох гIекколареб. 552. Ругъун сахлъаниги, гIуж кибего унареб. 553. Ругьунаб гуреб роццалда тIажу рекъоларебила. 554. Ругьунаб оцалълъ гIадин хур бекьуларо. 555. Рузида къад канлъи бихьунгутIи бакъул гIайиб гуреб. 556. Рузман чIирчIидулеб, шамат бадарулеб. 557. Рузманкъо битIани, киналго къоял ритIулел. 558. Рукъ бакъараб ссадакъа гьабуге. 559. Рукъ бакъараб ссадакъа – чехь бакъараб къадеквен. 560. Рукъ бала гIадамал цIунизе, ярагъ бала гIадамал гъуризе. 561. Рукъ берцинлъула къачIаялълъ, чи берцинлъула гIелмуялълъ. 562. Рукъ бечелъаги, чи гIемерлъаги. 563. Рукъ бикъидал, къоно тIамурав (Рукъ бикъун ххадуб гуребила къоно тIамулеб). 564. Рукъ босилалде, мадугьал цIеххе. 565. Рукъ гьабулареб жоялълъ къватI гьабулареб. 566. Рукъ гьечIелълъуб хъошги рукъила. 567. Рукъ гьечIессда чи лъала, чед гьечIессда мацIцI лъала. 568. Рукъ гьитIинаб букIин гьоболассдайила лъалеб. 569. Рукъ къваридав чи – лълъади квешав чи. 570. Рукъ лълъухьараб меххалълъ, хIур бахъунеб гIадат. 571. Рукъ рукъалълъ тIубаги, къайи къайиялълъ цIунаги. 572. Рукъалда асскIоб цIцIорораб иццги тун, хьуцIцIил лълъеда ххадув довегIан унарев. 573. Рукъалда лъалареб къватIалда лъан батулеб, нилIедаго бихьичIеб чияда бихьун батулеб (НилIер – чияда, чияр – нилIеда). 574. Рукъалда нах бахунареб даранги гьабуге, гьойдул балъ гьабулев чи гIадин, гIададаги хIалтIуге. 575. Рукъалда нуцIцIа гьечIев, ахикье гъалду гьечIев. 576. Рукъалда нуцIцIа лъолеб рагьизеги къазеги. 577. Рукъалдасса ххирияб бакІ гьечIеб, лъимадасса ххирияб жо гьечIеб. 578. Рукъалълъ басра гьавурав къватIалълъ ццеве кколарев. 579. Рукъалълъ бетIергьанчи гурев берцин гьавулев, бетIергьанчиясс рукъин гьабулеб. 580. Рукъалълъе кинаб бугониги пайда гьабичIеб къо – гIадада араб къо. 581. Рукъалълъул асслу – кьучIчI, хъизамалълъул асслу – чIчIужу. 582. Рукъалълъул бетIергьанасс гьумер битІичIони, гьобол тIокIав вачIунарев, тIилил бухIи гIезабуни, кето баккарулареб. 583. Рукъалълъул бетIергьанассде мутIигIлъулареб рокъоб гIадлу букIунареб. 584. Рукъалълъул гьечIолъи царгъицца баххчула, черххалълъул гьечIолъи тIингъицца баххчула. 585. Рукъалълъул иххтияр бетIергьанчияссухъ тейила. 586. Рукъалълъул къварилъи къадазда лъала, Дир рекIел къварилъи дидаго лъала. 587. Рукъалълъул къварилъи къватIиб лъагеги, къватIул ххабар рокъоб лъагеги. 588. Рукъалълъул кIалтIа хIелекоги багъулеб, кавудал кIалтIа лъималги рагъулел. 589. Рукъалълъул кIудияв меххтичIони, бертин бетулареб. 590. Рукъалълъул хIал лъималазда лъала, къватIалълъул хIал гIабдалассда лъала. 591. Рукъалълъул ургъел къадаздаги лъалеб. 592. Рукъи бай, каратI кIодолъилалде, дару гьабе, унти ххалалъилалде. 593. Рукъи бараб бугониги, ретIелги гIолеб, хъош гIадаб бугониги, рукъги бегьулеб, мамá гьечIого, чи тIуваларев. 594. Рукъи бараб ретIел ретIунаревги чи гуревила, рукъиялда тIад рукъи баравги чи гуревила. 595. Рукъзал кунарел, кули ретIунареб. 596. Рукъилан абураб бакIалде рукъгIанассеб гьецIцIо босулеб. 597. РукIкIадул рорлIигIанассеб картIиниссан оцол бетIергIанассеб квач бачIунебила. 598. РукIкIен аралълъубейила кунги унеб 599. РукIниб букIун гъулгъудун, гъалбацIалълъ чан чIваларо. 600. Румазул гулгун гIадин, габур цIцIабуцIцIунги вукIунге, эбел-эмен хварав гIадин, гIодовеги къулуге. 601. Руссун херлъичIони, чу херлъуларо. 602. Рухьен тIун, тIил бекун, виччарав. 603. РухI бащад буго, рукь бащад цIцIай! 604. РухI бихьунила хIанчIидасса би баккулеб. 605. РухI речIчIилалде тушман чIваларев рухI речIчIараб меххалълъ тушманасс чIвалев. 606. РухIалда рекъонила биги тIинкIулеб. 607. РухIалицца гIадин чи херлъуларо, мискинлъиялълъ гIадин чи къулуларо. 608. РухIел кIочон тезабулеб ракъиялълъ, квен кIочон тезабулеб ццидацца. 609. Ручун кIудияб – жаниб рак гьечIеб, тIину кIудияб – жаниб мугь гьечIеб. 610. Руччабазда балъгояб жо жундуз бицунебила. 611. Руччабазул базаралълъ рукъ ццебе тIоларо. 612. Руччаби кIодо гьарулел лълъикIав чиясс, ятим инжит гьавулев хIалихьатав чиясс. 613. Рущада гьабураб мусрада гурони толареб. 614. Рущи щваралълъубе гIанкIу бачIунеб, жалго реэдаралълъуре лъимал рачIунел. 615. Рущи щваралълъубе гIанкIу буссуна, каву кIудиялълъуве гьардохъан ссверула.

  • ch | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Къ q Къабулаб ссадакъалъун батаги. qabulab Sadaqa;un batagi. Къад гьабураб бихьулеб, къасси гьабураб рагIулеб. qad haburab bi%uleb, qaSi haburab rafuleb. Къад кьерхун, къасси роцIцIун – хур-ххералълъе балагь, херав чияссул бахIарай лълъади – рукъалълъе балагь. qad per[un, qaSi ro~un - [ur-{era:e balah, [eraw xiyaSul ba\aray :adi - ruqa:e balah. Къад маккалълъ, къасси хIанчIчIалълъ. qad maKa:, qaSi \anZa:. Къадада гьикъарабила мун кида биххулебилан. Гьелълъ абурабила, кьекIкIелалда гьикъеян. ХIамица абурабила, цо гамачI кколеб кьекIкIлаццайищила мун кколеб, гьале гьаб жинцца кколилан. qadada hiqarabila mun kida bi{ulebilan. he: aburabila, peJelalda hiqeyan. \amiCa aburabila, co gamaz Koleb peJlaCayi&ila mun Koleb, hale hab $inCa Kolilan. Къададаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел. qadadagi fundul rugel, fal{udagi beral rugel. Къадал кьучIчI хIамайила, хIуби кьекIкIелила. qadal puZ \amayila, \ubi peJelila. Къаданиб гIарцул таргьаги лъун, вакъуцца хварав. qadanib farcul tarhagi ;un, waquCa [waraw. Къадараб жо гьабизе бегьулареблъи лъалеб гIадин, къадараб цIцIар лъеларедухъ хьвадизеги лъазе кколеб. qadarab $o habi#e behulareb;i ;aleb fadin, qadarab ~ar ;elaredu] %wadi#egi ;a#e Koleb. Къадараб бакIалдассан ригьин гьабуни, къо ккедал ватуларев вас гьавулевила. qadarab bajaldaSan rihin habuni, qo Kedal watularew was hawulewila. Къадараб чода рекIун иналдасса, раччиги баччун, лъелго ин лълъикIаб. qadarab xoda rejun inaldaSa, raXigi baXun, ;elgo in :ijab. Къадарав гьудуласс унтидал тола, лълъикIав гьудуласс хабал рагIалда гурони толаро. qadaraw hudulaS untidal tola, :ijaw hudulaS [abal rafalda guroni tolaro. Къадарав чи къурассда тIасса вахъунарев, бергьарассда гъоркьа вахъунарев. qadaraw xi quraSda TaSa wa]unarew, berharaSda vorpa wa]unarew. Къадарав чи сабаблъун нусгоявги ссурулев. qadaraw xi sabab;un nusgoyawgi Surulew. Къадарав чияссдасса къасси гъассдакквелалълъе бараб къвалиго лълъикIила. qadaraw xiyaSdaSa qaSi vaSdaKwela:e barab qwaligo :ijila. Къадарав чияссе гьабураб лълъикIлъи – гьойдул габуралда бараб месед. qadaraw xiyaSe haburab :ij;i - hoydul gaburalda barab mesed. Къадарав чияссе гьабураб лълъикIлъиги – дуего балагьалълъе, лебалав чияссе гьабураб квешлъиги – дуего балагьалълъе. qadaraw xiyaSe haburab :ij;igi - duyego balaha:e, lebalaw xiyaSe haburab kwe^;igi - duyego balaha:e. Къадарав чияссе лълъикIаб бициналдасса лълъикIав чияссе наку чIвайго лълъикI. qadaraw xiyaSe :ijab bicinaldaSa :ijaw xiyaSe naku zwaygo :ij. Къадарав чияссул багьа – къан рачIчI ккун цIцIе. qadaraw xiyaSul baha - qan raZ Kun ~e. Къадарав чияссул чIухIи кьолбол кIодолъиялдалъунги букIунеб. qadaraw xiyaSul zu\i polbol jodo;iyalda;ungi bujuneb. Къадараван абизеги бокьуларев, къадарлъиги толарев. qadarawn abi#egi bopularew, qadar;igi tolarew. Къадахъаби гIемерлъани, къед гьетIараб лIугьунеб. qada]abi femer;ani, qed heTarab /uhuneb. Къаденахъе мегIерги бегуге, бакъанида росуги тоге. qadena]e mefergi beguge, baqanida rosugi toge. Къадкиццагицин цин бусен гьабула, ххадур тIанчIи рахъула. qadkiCagicin cin busen habula, {adur Tanzi ra]ula. Къадру гIолохъанго цIунейила. qadru folo]ango `uneyila. Къажар базаралда кинавго чи беццав ватани, гьезда релълъине цояб бер дуццаги къинкIейила. qa$ar ba#aralda kinawgo xi beCaw watani, he#da re:ine coyab ber duCagi qinjeyila. Къажарасс хIамида тIилги, мухь кьечIого, кьабуларебила. qa$araS \amida Tilgi, mu% pezogo, pabularebila. Къажарассулги хIамилги херлъи-бахIарлъи лъаларебила. qa$araSulgi \amilgi [er;i-ba\ar;i ;alarebila. Къазе кIолареб кIалтIуги рагьуге, бичизе кIолареб гарацIцIги баге. qa#e jolareb jalTugi rahuge, bixi#e jolareb gara~gi bage. Къазе цаби гьечIони, кIутIбигIаги рукъе. qa#e cabi hezoni, juTbifagi ruqe. Къайи босе, дурго рокъоб рекъараб, чIчIужу яче, дургун гIамал рекъарай. qayi bose, durgo roqob reqarab, Zu$u yaxe, durgun famal reqaray. Къали цIцIамул цадахъ чIчIикIичIого, чи лъаларев. qali ~amul cada] Zijizogo, xi ;alarew. Къалмил мацIцI – бегIераб жо. qalmil ma~ - beferab $o. Къалмицца басанщинаб жоялълъул ххабар лIугьунареб, ракIалде щванщиналълъул кечI лIугьунареб. qalmiCa basan&inab $oya:ul {abar /uhunareb, rajalde &wan&ina:ul kez /uhunareb. Къалмицца хъваге, гIакълуялълъ хъвай. qalmiCa ]wage, faqluya: ]way. Къалмицца хъвараб гIощтIоцца къотIулареб. qalmiCa ]warab fo&ToCa qoTulareb. Къалъизеган гIадамалгун къаццандулев, къалъудасса нахъе Аллагьгун къаццандулев. qa;i#efan fadamalgun qaCandulew, qa;udaSa na]e allahgun qaCandulew. КъалъичIого къо беццуге, къинлъичIого нус еццуге. qa;izogo qo beCuge, qin;izogo nus yeCuge. Къан зарукьги ккогейила, квер биххунги биччагейила. qan #arupgi Kogeyila, kwer bi{ungi biXageyila. Къан хIамил рачIчI чIчIолареб, рахъдал гьабун чед чIчIолареб. qan \amil raZ Zolareb, ra]dal habun xed Zolareb. Къан цIцIуледухъ виччизеги вукIунге, векиледухъ вакъвазеги вукIунге. qan ~uledu] wiXi#egi wujunge, wekiledu] waqwa#egi wujunge. Къани зарукьеги унев, виччан тани дунялги цIолев. qani #arupegi unew, wiXan tani dunyalgi `olew. Къанщарал беракьа чи нечоларев. qan&aral berapa xi nexolarew. Къараб квер рагьуларев, къараб нуцIцIа ричIуларев. qarab kwer rahularew, qarab nu~a rizularew. Къараб нуцIцIидаги – анцIго бер, рахараб рукъалдаги – нусго гIин. qarab nu~idagi - an`go ber, ra[arab ruqaldagi - nusgo fin. Къарассда гурони, заз унтуларо, ккарассда гурони, рокьи лъаларо. qaraSda guroni, #a# untularo, KaraSda guroni, ropi ;alaro. Къарз босулеб къоялълъ – гьоцIцIокIал, бецIизе ккараб къоялълъ – букIкIараб нодо. qar# bosuleb qoya: - ho~ojal, be`i#e Karab qoya: - buJarab nodo. Къарз ваццассеги гьабуге, гьоркьоблъи хунгутIизе. qar# waCaSegi habuge, horpob;i [unguTi#e. Къарзалълъе жо кьей – рокьи къотIулеб кIвекьмахх гIадаб жо. qar#a:e $o pey - ropi qoTuleb jwepma{ fadab $o. Къаркъала бугъилав, ракI хIанчIчIилав. qarqala buvilaw, raj \anXilaw. Къаркъала турула, лълъикIлъи холаро. qarqala turula, :ij;i [olaro. Къаркъала херлъаниги, ракI херлъулареб (Дун жеги бахIарго бугилан абурабила ракIалълъ. Бугищан бихьизе цо дихъ балагьеян абурабила къаркъалаялълъ). qarqala [er;anigi, raj [er;ulareb (dun $egi ba\argo bugilan aburabila raja:. bugi&an bi%i#e co di] balaheyan aburabila qarqalaya:). Къарумав мадугьалассдассаги цIунаги, рекIел гьава кIудияв мискинчияссдассаги цIунаги! qarumaw maduhalaSdaSagi `unagi, rejel hawa judiyaw miskinxiyaSdaSagi `unagi! Къарумассул боцIцIи ирга щоларесс кунеб. qarumaSul bo~i irga &olareS kuneb. Къарумассул квер къараб – кIал рагьараб, саххаватассул кIал къараб – квер рагьараб. qarumaSul kwer qarab - jal raharab sa{awataSul jal qarab - kwer raharab. Къарумассулгун даранги гьабуге, къохIехьоларессда цадахъ кьалдеги унге. qarumaSulgun darangi habuge, qo\e%olareSda cada] paldegi unge. КъартI гьечIей яс – рас гьечIеб бетIер. qarT hezey yas - ras hezeb beTer. Къассд бихьун гIамалила, гIамал бихьун хIалтIийила. qaSd bi%un famalila, famal bi%un \alTiyila. Къасси бусада лъечIеб бетIер радал тIаде борххизе батулареб. qaSi busada ;ezeb beTer radal Tade bor{i#e batulareb. Къасси вахъун, къад кьижун, рузил гIамал жибго те. qaSi wa]un, qad pi$un, ru#il famal $ibgo te. Къасси лъолеб тIагъур къадги лъоге, къад лъолеб тIагъур къассиги лъоге. qaSi ;oleb Tavur qadgi ;oge, qad ;oleb Tavur qaSigi ;oge. Къасси роцIцIун, къад кьерхун – хуруе балагь, херав чиясс бахIарай чIчIужу ячин – рукъалълъе балагь. qaSi ro~un, qad per[un - [uruye balah, [eraw xiyaS ba\aray Zu$u yaxin - ruqa:e balah. КъатIраби данделъунила лълъадал ралъад лIугьунеб. qaTrabi dende;unila :adal ra;ad /uhuneb. КъачIеб ххариниб ххер бижуларо. qazeb {arinib {er bi$ularo. Къвакъвай – хъазил, хоно – къурщил. qwaqway - ]a#il, [ono - qur&il. Къвали бахъулаго, тIилал тIехIарав, тIин-хоро кунаго, кIал гIурччинлъарав. qwali ba]ulago, Tilal Te\araw, Tin-[oro kunago, jal furXin;araw. КъваригIани ахIизе ХIохьочида цIцIар лъала. qwarifani a\i#e \o%oxida ~ar ;ala. КъваригIараб меххалълъ – КъурамухIума, къваригIинчIеб меххалълъ – Бабал МухIума. qwarifarab me{a: - quramu\uma, qwarifinzeb me{a: - babal mu\uma. КъваригIел гьечIого гIегIедараб хIелеко царал кIалдибе ккарабила. qwarifel hezogo fefedarab \eleko caral jaldibe Karabila. КъваригIел гьечIого хIапулеб гьой ххеххго херлъулеб. qwarifel hezogo \a_uleb hoy {e{go [er;uleb. КъваригIел ккун ахIулеб меххалълъ – ХIажимурадил Давуд, къваригIел гьечIеб меххалълъ – ХIанкIил Давуд. qwarifel Kun a\uleb me{a: - \a$imuradil dawud, qwarifel hezeb me{a: - \anjil dawud. КъваригIинарилан ккараб жо цо къоялълъ къваригIунеб. qwarifilarilan Karab $o co qoya: qwarifuneb. КъваригIинарила анцIго рукъалълъе къого гьобо. qwarifinarila an`go ruqa:e qogo hobo. КъваригIинчIеб босани, къваригIараб бичизе ккола. qwarifinzeb bosani, qwarifarab bixi#e Kola. Къварилъи бихьичIессда гIатIилъиялълъул къимат лъалареб. qwari;i bi%izeSda faTi;iya:ul qimat ;alareb. Къварилъи бищун ццебе къобухIаралълъубейила бачIунеб. qwari;i bi&un Cebe qobu\ara:ubeyila bazuneb. Къварилъи кидаго букIунареб, гьеб хисизе гIатIилъи бачIунеб. qwari;i kidago bujunareb, heb [isi#e faTi;i bazuneb. Къварилъи ккарасс цохIо бугеб оц хъвелиланги абулебила. qwari;i KaraS co\o bugeb oc ]welilangi abulebila. Къварилъи ккедалила чи лъалев. qwari;i Kedalila xi ;alew. Къварилъиги къадарги къед борлIунги рачIунелила. qwari;igi qadargi qed bor/ungi razunelila. КъватIиб гьури-муч кIудияв, рокъоб, оц тIурани, лIарада базе жо гьечIев. qwaTib huri-mux judiyaw, roqob, oc Turani, /arada ba#e $o hezew. КъватIиб чан гьабуни, чи гьалаглъулев. qwaTib xan habuni, xi halag;ulew. КъватIиве ккараб меххалълъ къватIулжо гIадин вукIа. qwaTiwe Karab me{a: qwaTul$o fadin wuja. КъватIисса чIчIужу ячани, рукъалда асскIоб рукъ букIунаро, хуралда асскIоб хур букIунаро. qwaTiSa Zu$u yaxani, ruqalda aSjob ruq bujunaro, [uralda aSjob [ur bujunaro. КъватIисса чIчIужу ячани, таргьида рухьен биццатаб базе кколебила. qwaTiSa Zu$u yaxani, tarhida ru%en biCatab ba#e Kolebila. КъватIисса чIчIужу ячарав чи – нух бичун босарав чи. qwaTiSa Zu$u yaxaraw xi - nu[ bixun bosaraw xi. КъватIисса щолеб гIарацалдасса рокъоб щолеб пахьго лълъикI. qwaTiSa &oleb faracaldaSa roqob &oleb _a%go :ij. КъватIул цIцIогьор кIулаз кколевила, рукъалълъул цIцIогьор ссунццаго кколаревила. qwaTul ~ohor jula# Kolewila, ruqa:ul ~ohor SunCago Kolarewila. КъвачIа ххун къо – лълъикIаб къо, нахъияб къо – квешаб къо. qwaza {un qo - :ijab qo, na]iyab qo - kwe^ab qo. КъвачIида рекъараб рукъи камулареб. qwazida reqarab ruqi kamulareb. КъвачIил кIал бухьунареб. qwazil jal bu%unareb. КъвачIил ххеней барай, хведрал цIа барай. qwazil {eney baray, [wedral `a baray. КъвачIитIа къачIони, гьиритIа букIунареб. qwaziTa qazoni, hiriTa bujunareb. Къади чIвалароанила, къасси бетIер къаданижоялда лъун букIарабани. qadi zwalaroanila, qaSi beTer qadani$oyalda ;un bujarabani. СардилI Шайиххил МухIумида рагIулеб букIун буго гIадамазул гара-чIвари, рихха-ххочарал гьаркьал. МухIумил нуцIцIидаги кIутIун, цоясс абун буго. sardi/ ^ayi{il mu\umida rafuleb bujun bugo fadama#ul gara-zwari, ri{a-{oxaral harpal. mu\umil nu~idagi juTun, coyaS abun bugo. - Мун щай тIаде вахъунарев? Дур мадугьал Къади чIван вуго! - mun &ay Tade wa]unarew? dur maduhal qadi zwan wugo! НуцIцIида тункарассе Шайиххил МухIумицца кицилъун лIугьарал гьадал рагIабаздалъун жаваб кьун буго. nu~ida tunkaraSe ^ayi{il mu\umiCa kici;un /uharal hadal rafaba#da;un $awab pun bugo. Къебедассул квер меседил, кочIохъанассул рагIи меседил. qebedaSul kwer mesedil, kozo]anaSul rafi mesedil. Къед биххараб меххалълъ бахъинчIеб хIур нахъа бахъунареб. qed bi{arab me{a: ba]inzeb \ur na]a ba]unareb. Къелеб ракьа квараб гьой ГьидалI чIчIолареб (КъватIиссан щвараб ххинкI гьуинлъарав чи рокъов чIчIоларев). qeleb rapa kwarab hoy hida/ Zolareb (qwaTiSan &warab {inj huin;araw xi roqow Zolarew). КъелI хъазан речIчIараб къо бачIунгеги. qe/ ]a#an reZarab qo bazungegi. Къечон гуребила чIагIа гьекъолеб. qexon gurebila zafa heqoleb. Къечедал гуребила гъуй бухъулеб. qexedal gurebila vuy bu]uleb. Къимат кьезе гIедегIуге, гIадан дуе ралъад гурев. qimat pe#e fedefuge, fadan duye ra;ad gurew. Къинаб квер хIорго тани, хIажатаб жо щолареб (Къинал кверал хIор гьарун, хIалихьалъи баччуге). qinab kwer \orgo tani, \a$atab $o &olareb (qinal kweral \or harun, \ali%a;i baXuge). Къинлъуларей чIчIужуялдасса къинлъулеб гIанкIуго лълъикIила. qin;ularey Zu$uyaldaSa qin;uleb fanjugo :ijila. Къинлъун хоно гуреб, хун гьан гуреб. qin;un [ono gureb, [un han gureb. Къисматги къадарги къед борлIунги бачIунебила. qismatgi qadargi qed bor/ungi bazunebila. Къирбалалълъул гьури – кьерхадул ццебехъан, тIассагьури – квачалълъул ццебехъан. qirbala:ul huri - per[adul Cebe]an, TaSahuri - kwaxa:ul Cebe]an. Къо арабгIан лъалареб лъагIелги букIунеб, лъагIелгIан ххалатаб къоги букIунеб. qo arabfan ;alareb ;afelgi bujuneb, ;afelfan {alatab qogi bujuneb. Къо бихьичIессул чи лIугьунарев. qo bi%izeSul xi /uhunarew. Къо бихьичIого щвараб бечелъи гьороцца унебила. qo bi%izogo &warab bexe;i horoCa unebila. Къо бихьичIого щвараб боцIцIи хIехьоларебила. qo bi%izogo &warab bo~i \e%olarebila. Къо бихьун щвараб гъурущ къо бихьичIого щвараб туменалдасса къиматаб. qo bi%un &warab vuru& qo bi%izogo &warab tumenaldaSa qimatab. Къо бихьун щварабгIан ххинкI гьуинабила. qo bi%un &warabfan {inj huinabila. Къо бихьунила меседо гьинде яхуней. qo bi%unila mesedo hinde ya[uney. Къо гьечIебани, сардил бецIлъи лъалароан. qo hezebani, sardil be`;i ;alaroan. Къо гьечIелълъуб асс гьечIеб. qo heze:un aS hezeb. Къо кинаб букIарабали пикру къасси гьабе. qo kinab bujarabali _ikru qaSi habe. Къо ккани, къоркъолги бацI лIугьунебила. qo Kani, qorqolgi ba` /uhunebila. Къого бихьичIого чилъи бокьарасс, ярагъго гьечIого, рагъде къассд гьабе. qogo bi%izogo xi;i boparaS, yaravgo hezogo, ravde qaSd habe. Къойил гъеду ахIданиги, бачIунаребила их, цо къоялълъ гагу ахIдани, бачIунебила. qoyil vedu a\danigi, bazunarebila i[, co qoya: gagu a\dani, bazunebila. Къойилго букIунаан дун анибилан абурабила хIамицца. Жакъа гурони жиб тIаде ккечIилан абурабила бацIицца qoyilgo bujunaan dun anibilan aburabila \amiCa. $aqa guroni $ib Tade Kezilan aburabila ba`iCa ХхарибакIалда кваналеб хIамида тIаде ккун буго бацI. {aribajalda kwanaleb \amida Tade Kun bugo ba`. Гьеб чIвазе багьанаги балагьун, бацI хIамиде хъихъидун буго: мун гьаниб щиб гьабулебин, лълъиццайин мун гьанибе биччарабилан. heb zwa#e bahanagi balahun, ba` \amide ]i]idun bugo, mun hanib &ib habulebin, :iCayin mun hanibe biXarabilan. ХIамицца гIила бачун буго, къойилго букIунеб, жиндир ругьунаб бакI бугин гьабилан. \amiCa fila baxun bugo, qoyilgo bujuneb, $indir ruhunab baj bugin habilin. Жакъа гурони жиб тIаде ккечIилан, бацIицца хIама чIван буго. $aqa guroni $ib Tade Kezilan, ba`iCa \ama zwan bugo. Кици хIалтIизабула щибаб къоялълъ гьабулеб ххиянат цо къолъялъ къватIиб чIвала абураб магIнаялдаги. kici \alTi#abula &ibab qoya: habuleb {iyanat co qoya: qwaTib zwala aburab mafnayaldagi. Къокъид арав ххутIарав, ххалат арав вуссарав (Къокъиднухалълъ арав вуссинчIевила, шагьраялълъ арав вуссаравила). qoqid araw {uTaraw, {alat ataw wuSaraw (qoqidnu[a: araw wuSinzewila, ^ahraya: araw wuSarawila). Къойил шагьи нахъе реххе, къваригIараб къоялълъ чияда ццебе хъат ккунгутIизе. qoyil ^ahi na]e re{e, qwarifarab qoya: xiyada Cebe ]at KunguTi#e. Къолев чияссдасса бергьиналдасса бергьунев чияссдасса къейго лълъикIаб. qolew xiyaSdaSa berhinaldaSa berhunew xiyaSdaSa qeygo :ijab. Къолол гьаркьида бараб букIуна кьурдухъанассул хIатIил роси. qolol harpida barab bujuna purdu]anaSul \aTil rosi. Къолол дагIба бани, ссахIил ххайир кколеб (боххил дагIба бани, ратIагIаги камулареб). qolol dafba bani, Sa\il {ayir Koleb (bo{il dafba bani, raTafagi kamulareb). Къориниб бугеб анцIгоялдасса къвачIиниб бугеб цо лълъикIаб. qorinib bugeb an`goyaldaSa qwazinib bugeb co :ijab. Къоркъоцца тIанчIие рецц-бакъ гьабулебила, гьел дур беразулги берцинлъийила, тIомолги гьайбалъийила, кIварщалълъулги ххалалъийила. qorqoCa Tanziye reC-baq habulebila, hel dur bera#ulgi bercin;iyila, Tomolgi hayba;iyila, jwar&a:ulgi {ala;iyila. Къорола эххеде бахин – роцIцIадул гIаламат, гIодобе бачIин – кьерхадул гIаламат. qorola e{ede ba[in - ro~adul falamat, fodobe bazin - per[adul falamat. Къоролав чIчIужу абизе витIуларев. qorolaw Zu$u abi#e wiTularew. Къоролалълъ хьихьараб гIакаги босуге, къоролалълъ куцарай ясги ячунге. qorola: %i%arab fakagi bosuge, qorola: kucaray yasgi yaxunge. Къоролалълъ хьихьарав васасс къо хIехьолареб. qoro;a: %i%araw wasaS qo \e%olareb. Къоролалълъул макруялдасса цIунаги. qorola:ul makruyaldaSa `unagi. Къоролалълъул ракI – ихдалил къо (Къоролалълъул ракI ихдалил къо гIадин хисардулебила). qorola:ul raj - i[dalil qo (qorola:ul raj i[dalil qo fadin [isardulebila). Къоролалълъул рокъоб гIураб катицца гIункIкI кколаребила. qorola:ul roqob furab katiCa funJ Kolarebila. Къоролалълъул хIал къоролалда гурони бичIчIулареб. qorola:ul \al qorolalda guroni biZulareb. Къоролалълъул чехь мугъ ссверунги букIунеб. qorola:ul xe% muv Swerungi bujuneb. Къосунаревила мурид, къосине ккани, цIакъго къосуневила. qosunarewila murid, qosine Kani, `aqgo qosunewila. КъотIи тIубаларессда асскIовеги къаге, баркала лъаларессе кумекги гьабуге. qoTi TubalareSda aSjowegi qage, barkala ;alareSe kumekgi habuge. КъотIноб хIарщ букIунилан, хIама рокъоб толареб. qoTnob \ar& bujunilan, \ama roqob tolareb. 137. КъохIехьеялълъила иш гьабулеб. qo\e%eyaya:ila i^ habuleb. 138. Къохьол шарбал ретIарав, къадкил хьалбал гьарурав. qo%ol ^arbal reTaraw, qadkil %albal haruraw. 139. КъочIчIолIе гIебу гIадин. qoZo/e febu fadin. 140. Къоялълъги ассалълъги къадарлъи баххчулареб. qoya:gi aSa:gi qadar;i ba{xulareb. 141. Къоял тIагIун, киналго холел, анищ тIагIун, щивго холарев. qoyal Tafun, kinalgo [olel, ani& Tafun, &iwgo [olarew. 142. Къуват бугев гуревила кутакав, ццин бахъараб меххалълъ гьеб къулчIчIизе кIолевила кутакав. quwat bugew gurewila kutakaw, Cin ba]arab me{a: heb qulZi#e jolewila kutakaw. 143. Къуват бугелълъуб ссабру цIцIикIкIараб, ссабру цIцIикIкIарассул гIумру ххалатаб. quwat buge:ub Sabru ~iJarab, Sabru ~iJaraSul fumru {alatab. 144. Къуват къезабулеб къуват гIемер бугеб, ххалкъалълъул къуват ссунццаго къезабулареб. quwat qe#abuleb quwat femer bugeb, {alqa:ul quwat SunCago qe#abulareb. 145. Къуватав цояссдасса бергьунев, цIцIодорав анцIгояссдасса бергьунев. quwataw coyaSdaSa berhunew, ~odoraw an`goyaSdaSa berhunew. 146. Къуваталдасса гIакълу бергьунеб. quwataldaSa faqlu berhuneb. 147. Къуватассе хIелулев, хIал бугессе къулулев. quwataSe \elulew, \al bugeSe qululew. 148. Къуватассул ссабру букIуна, ссабруялълъул кIодолъи букIуна. quwaraSul Sabru bujuna, Sabruya:ul jodo;i bujuna. 149. Къулизе лъарассда ворххизеги лъала. quli#e ;alaSda wor{i#egi ;ala. 150. Къулиладаян могьода гьикъарай, къотIиладаян сумалда гьи - къарай. quliladayan mohoda hiqaray, qoTiladayan sumalda hi - qaray. 151. Къулилалде воржунге. qulilalde wor$unge. 152. КъуличIого ворххуге, чIамичIого къулчIуге. qulizogo wor{uge, zamizogo qulzuge. 153. КъуличIони ворххизе кIолареб. qulizoni wor{i#e jolareb. 154. КъулчIчIизе кIолареб жо хIанчIуге. qulZi#e jolareb $o \anzuge. 155. КъулчIчIилалде цIцIудуцца ракьа роццалда борцунебила. qulZilalde ~uduCa rapa roCalda borcunebila. 156. Къун вачIиналдасса хун вачIин лълъикIаб. qun wazinaldaSa [un wazin :ijab. 157. КъулчIчIун эххебеги унареб, аххун къватIибеги бачIунареб. qulZun e{ebegi unareb, a{un qwaTibegi bazunareb. 158. Къунмухьиде кьунилан ябучу босуге, бо бахъаралълъув нахъа ххутIула. qunmu%ide punilan yabuxu bosuge, bo ba]ara:uw na]a {uTula. 159. Къураб бакIалде ццин ххеххабила. qurab bajalde Cin {e{abila. 160. Къурассде ворта, хIалхвад! quraSde worta, \al[wad! 161. Къурассул рекIел унти – бергьарав чIвалеб чIор. quraSul rejel unti - berharaw zwaleb zor. 162. Къурбандил МухIумицца катида ниха гIадин. qurbandil mu\umiCa katida ni[a fadin. Къурбандил МухIумида мадугьаласс бицун буго жиндир катицца гьан кунарин, щиб кьуниги чIухIдарулилан. Къурбандил МухIумицца абун буго жиндир катиццани нихагицин кунилан. Мадугьаласс гьарун буго, бегьулеб батани, жиндир кетоги кьураб квен кваназе ругьун гьабеян. qurbandil mu\umida maduhalaS bicun bugo $indir katiCa han kunarin, &ib punigi zu\darulilan. qurbandil mu\umiCa abun bugo $indir katiCani ni]agicin kunilan. maduhalaS harun bugo, behuleb batani, $indir ketogi purab kwen kwana#e ruhun habeyan. Чанго къоялълъ МухIумицца мадугьалассул кето хIобода бухьун буго. Цинги, ххадув чиги витIун ахIун вачIарав мадугьалги валагьун, гьелда ццебе хъат цIураб ниха бан буго. Бакъараб катиццаги гьеб, цо мугь течIого, кванан буго. xango qoya: mu\umiCa maduhalaSul keto \oboda bu%un bugo. cingi, {aduw xigi wiTun a\un wazaraw maduhalgi walahun, helda Cebe ]at `urab ni[a ban bugo. baqarab katiCa heb, co muh tezogo, kwanan bugo.

  • xh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    С s 1. Сабаб тIагIараб жо – гIажал, гIадан холеб жо – ххиял. 2. Саву кьарияб, кьаву хIалакъаб. 3. Саву кьун, кьаву босуге. 4. СагърикьотIа гьабураб ГьимагIурухъ батулеб. 5. СагIат гьечIеб рукъ – гIака гьечIеб бокь. 6. СагIат гьечIев беццав, рузнама гьечIев рекъав. 7. СагIаталълъул гIадлу соналълъул гIибадаталдасса лълъикIаб. 8. СагIатгIан ххалатабги букIунебила къо, лъагIелгIан ххалатабги букIунебила. 9. Сайигъат бачIарав – таххида, бачIинчIев – туртида. 10. Сайигъаталълъе кьоло-гъолон чу щварасс цадахъ ярагъги щай гьечIебилан абурабила. 11. «Салам гIалайкумалълъ» гIи гъурараб, апарагасс росу хвараб. 12. Саламалда рекъарабила жавабги букIунеб. 13. Сапаралдасса, гамачI босунги, чIорого рачIунгейила. 14. Сапаралде вахъунесс хъабарча рокъоб тоге. 15. Сапарцадахъ лъазе бокьани, гьессул хьитинибе чIимихх реххейила. 16. Сапнацца чурунилан чIчIегIерцIцIвак хъахIлъиларо. 17. Сариси гуреб букIун бугеб, тIатIи букIун буго (ХIамида оххцер квине щибила лъалеб). 18. Сардил ххалалъи лъалеб унтарассда, къойил ххалалъи лъалеб вакъарассда. 19. Сасу бекуларо, кун тIечIелдасса. 20. Сасу кьун, рукIкIен кьунила рокьи гьабулеб. 21. Сахаб гьой гважуда тIад речIчIулареб. 22. Сахав бахIарчияссе нусго гьунарги дагьаб. 23. Саххаватасс мусру чиядаги балебила, къарумасс жиндаго барабги кIкIунебила. 24. Сахлъи бокьани, бетIер гьогьмада, хIатIал ххинлъуда, чехь бакъун хьихьейила. Кибего цIцIар рагIарав тоххтир вукIаравила. ГIадамаз гьессда абулеб букIарабила, Аллагьассул къадаралде щоларев чиги вукIанарин, дуцца дурго устарлъиялълъул балъголъи, цадахъ босичIого, ххадур рачIунезе цIунун щайин толареб. Гьессги абулеб букIарабила, жинцца гьеб цадахъ босиларин, жив хун ххадуб, жиндир гъанссинире раккейин, гьениб батилин нужеда жиндир гьунаралълъул балъголъи хъвараб тIехь. Хванила тоххтир. Ракканила гьессул гъанссинире. Батанила гьениб цIакъ щулаго бухьа-къараб жо. Цо бечедав чиясс, ирсилаз абураб багьаги кьун, босарабила гьеб. Бихха-бичараб меххалълъ гьениб батарабила тIехь. Гьелълъул тIоццебессеб гьумералда ратаралила кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби, цогидал гьурмазда щибго хъван батичIебила. 25. Сахлъи букIаго, хIалтIи гьабе, черхх букIаго, ретIел ретIе. 26. Сахлъи гьечIеб унтудассаги нагагьаб балагьалдассаги цIунаги. 27. Сахлъи гьечIев хханассдасса сахлъи бугев лагъго талихIавила. 28. Сахлъи гьечIессе бечелъи щай? 29. Сахлъиги кьун, унти босарав. 30. Сег кванараб чода канлъи бихьулареб, бечелъараб меххалълъ чияссда чияр гIакълу берцин бихьулареб. 31. СихIираб гьимиялдасаги цIунаги, гьуинаб реццалдассаги цIунаги. 32. СихIирав гIабдал. 33. СихIирав чияссулгун даранги гьабуге, гIантав чияссулгун оцги баге. 34. Сордо базаеян гъотIода рещтIараб гъеду гIумруялълъго гьениб ххутIун рагIула. 35. Сордо бачIунареб къо букIунареб. 36. Сордо бецIцIаб бугогIан, цIцIваби гвангъун рукIуна. 37. Сордо къватIиб – ххинкI рокъоб. 38. Сордо сардие те. 39. Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна. 40. Сордо-къо цIцIикIкIарассул гIакълу цIцIикIкIараб. 41. Суалалда рекъон, къокъ гьабун, кье жаваб. 42. Сумал чIалу гьабуге, гьалил михир гьабуге. 43. Сумалда сум лъуни, гул лIугьунеб. 44. Сусур цIцIикIкIаралълъуб бугIа дагьаб, рагIи гIемералълъуб гIакълу дагьаб. 45. Сусур чIаралаго, ролIул чIорал гьоркьоре ккунги ратулел, гIакайилан ккун, хIама бечIчIулелги ратулел.

  • d | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ГI f 1. ГIаба ретIарассе дунги инчIила, чухъа ретIарав диеги щвечIила (чухъа ретIарасс дунги ячинчIила). faba reTaraSe dungi inzila, xu]a reTaraw diyegi &wezila (xu]a reTaraS dungi yaxinzila). 2. ГIабдал берталълъе ахIани, жив анивго чIчIелилан лIугьуневила. fabdal berta:e a\ani, $iw aniwgo Zelilan /uhunewila. 3. ГIабдал бищун ццеве гIиссинлъималаздайила лъалев. fabdal bi&un Cewe fiSin;imala#dayila ;alew. 4. ГIабдал вукIаниги, цIцIодор вукIаниги, аххир цойила. fabdal wujanigi, ~odor wujanigi, a{ir coyila. 5. ГIабдал гьечIони, цIцIогьорассе боцIцIи кисса? fabdal hezoni, ~odoraSe bo~i kiSa? 6. ГIабдал гIодиларо, цIцIодор велъиларо. fabdal fodilaro, ~odor we;ilaro. 7. ГIабдал кьурдуларевила, кьурдани, чIчIоларевила (чIчIезе лъаларебила). fabdal purdularewila, purdani, Zolarewila (Ze#e ;alarebil). 8. ГIабдал кIалъалелълъул, цIцIодор вуцIцIун чIчIолев. fabdal ja;ale:ul, ~odor wu~un Zolew. 9. ГIабдал лумо гьавизе росу бахъараб меххалълъ, гьесс гьикъарабила - «Чан мали бугонидай зодоре гIунтIила?». fabdal lumo hawi#e rosu ba]arab me{a:, heS hiqarabila - «xan mali bugoniday #odore funTila?». 10. ГIабдал рокъове виччаялдасса гIакъил лъорове виччай лълъикIаб. fabdal roqowe wiXayaldaSa faqil ;orowe wiXay :ijab. 11. ГIабдал хIалтIизеги вачунге, гIабдалассда цадахъги хIалтIуге. fabdal \alTi#egi waxunge, fabdalaSda cada]gi \alTuge. 12. ГIабдаласс боцIцIи балагьула, цIцIодорасс гIакълу балагьула. fabdalaS bo~i balahula, ~odoraS faqlu balahula. 13. ГIабдаласс вецциялдасса цIцIодорасс какиго лълъикIила. fabdalaS weCiyaldaSa ~odoraS kakigo :ijila. 14. ГIабдаласс гурони гIабдалассе гIакълу кьоларебила. fabdalaS guroni fabdalaSe faqlu polarebila. 15. ГIабдаласс гурони гIунгутIаби ралагьуларел. fabdalaS guroni funguTabi ralahularel. 16. ГIабдаласс гьедун бицунебила, гIакъиласс кици тIамун бицунебила. fabdalaS hedun bicunebila, faqilaS kici Tamun bicunebila. 17. ГIабдаласс гIодобе бала, цIцIодорасс бищула. (ГIабдаласс гIодобе бараб цIцIодорасс бищула). fabdalaS fodobe bala, ~odoraS bi&ula. (fabdalaS fodobe barab ~odoraS bi&ula). 18. ГIабдаласс квараб жоялълъул бицунеб, цIцIодорасс лъараб жоялълъул бицунеб. fabdalaS kwarab $oya:ul bicuneb, ~odoraS ;arab $oya:ul bicuneb. 19. ГIабдаласс малълъулелдеги гIин тIаме, битIараб батичIони гьабичIого те. fabdalaS ma:uleldegi fin Tame, biTarab batizoni habizogo te. 20. ГIабдаласс нилIее лъабго гIакълу кьуни, цоябниги битIараб батизе бегьулеб. fabdalaS ni/eye ;abgo faqlu puni, coyabnigi biTarab bati#e behuleb. 21. ГIабдалассда бицараб жо – базаралда ахIараб гIакIа. fabdalaSda bicarab $o - ba#aralda a\arab faja. 22. ГIабдалассда гуребила гIайиб букIунеб, гIабдал валъаргъарассдайила. fabdalaSda gurebila fayib bujuneb, fabdal wa;arvaraSdayila. 23. ГIабдалассда гIайиб чIчIоларебила. fabdalaSda fayib Zolarebila. 24. ГIабдалассда данде мунги гIабдаллъун чIчIайила. fabdalaSda dande mungi fabdal;un Zayila. 25. ГIабдалассда кигIан малълъараниги, гьесс жиндирабго гурони гьабулареб. fabdalaSda kifan ma:aranigi, heS $indirabgo guroni habulareb. 26. ГIабдалассда малълъараб жо – гIодобе бортараб чIор. fabdalaSda ma:arab $o - fodobe bortarab zor. 27. ГIабдалассда малълъарани мунго рихунев. fabdalaSda ma:arani mungo ri[unew. 28. ГIабдалассда нич гьечIеб, цIцIогьорассда яхI гьечIеб. fabdalaSda nix hezeb, ~ohoraSda ya\ hezeb. 29. ГIабдалассе бертин къойил букIунеб. fabdalaSe bertin qoyil bujuneb. 30. ГIабдалассе гIабдал вокьулев, гIакъилассе гIакъил вокьулев. fabdalaSe fabdal wopulew, faqilaSe faqil wopulew. 31. ГIабдалассе гIакъил вокьуларев, меххтарассе вигьарав вокьуларев. fabdalaSe faqil wopularew, me{taraSe wiharaw wopularew. 32. ГIабдалассе дару – данде кIалъачIого тей. fabdalaSe daru - dande ja;azogo tey. 33. ГIабдалассе гIадлу гьечIеб. fabdalaSe fadlu hezeb. 34. ГIабдалассул гIеч гIадин гьоркьов инеги чIчIоге. fabdalaSul fex fadin horpow inegi Zoge. 35. ГIабдалассул – зар, гIакъилассул – хIал. fabdalaSul - #ar, faqilaSul - \al. 36. ГIабдалассул кочIохъ гIенеккиялдасса цIцIодорассул семиялълъухъ гIенеккиго лълъикIила. fabdalaSul kozo] feneKiyaldaSa ~odoraSul semiya:u] feneKizogo :ijila. 37. ГIабдалассул кумекалдасса кумекчи гьечIого лълъикI. fabdalaSul kumekaldaSa kumekxi hezogo :ij. 38. ГIабдалассул кIалалда гIакIа гьечIеб. fabdalaSul jalalda faja hezeb. 39. ГIабдалассул – мацIцIалда, цIцIодорассул – рекIеда. fabdalaSul - ma~alda, ~odoraSul - rejeda. 40. ГIабдалассул мацIцIалълъги хIикматаб жо бицуна, щиб гьессул рагIийилан, гIин тIамичIого тоге. fabdalaSul ma~a:gi \ikmatab $o bicuna, &ib heSul rafiyilan, fin Tamizogo toge. 41. ГIабдалассул ракI – мацIцIалдайила, цIцIодорассул мацIцI – ракIалдайила. fabdalaSul raj - ma~aldayila, ~odoraSul ma~ - rajaldayila. 42. ГIабдалассул рекIелгъей умумузул асс-къоялде букIуна, гIакъилассул рекIелгъей лълъикIабщиналде букIуна. fabdalaSul rejelvey umumu#ul aS-qoyalde bujuna, faqilaSul rejelvey :ijab&inalde bujuna. 43. ГIабдалассулги гIакъилассулги аххир цойила (ГIабдал вегулебги – хоб, гIакъил вукъулебги – хоб). fabdalaSulgi faqilaSulgi a{ir coyila (fabdal wegulebgi - [ob, faqil wuqulebgi - [ob). 44. ГIабдалгун кваназегIан, цIцIодоргун вакъиго лълъикI. fabdalgun kwana#efan, ~odorgun waqigo :ij. 45. ГIабдалгун къаццандулев гьессдассаги гIантавила. fabdalgun qaCandulew heSdaSagi gantawila. 46. ГIабдалассулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун маххссараги гьабуге. fabdalaSulgun hudul;i habuge, hoydulgun ma{Saragi habuge. 47. ГIабдалги ахIмакъги рекъон чIчIоларо. fabdalgi a\maqgi reqon Zolaro. 48. ГIабдалги гуккуге, гIабдаласс гуккизеги чIчIоге. fabdalgi guKuge, fabdalaS guKi#egi Zoge. 49. ГIабдалги гIакъилги киназдаго лъала. fabdalgi faqilgi kina#dago ;ala. 50. ГIабдалгун къаццандуге, мунго къунгутIизе. fabdalgun qaCanduge, mungo qunguTi#e. 51. ГIабул чехъечIого, хоноги кунаро. fabul xe[ezogo, [onogi kunaro. 52. ГIагарав чияссул гьан кваниги, ракьа гIодобе реххизе бегьулареб. fagaraw xiyaSul han kwanigi, rapa fodobe re{i#e behulareb. 53. ГIагарлъи лъала къо ккедал, гьудул лъала къваригIел ккедал. fagar;i ;ala qo Kedal, hudul ;ala qwarifel Kedal. 54. ГIагарлъи лъаларессе алжан гьечIебила. fagar;i ;alareSe al$an hezebila. 55. ГIагарлъи цIуне чIаго рукIаго, хвараб меххалълъ «гIагарал чагIи» чанги ратулел. fagar;i `une zago rujago, [warab me{a: «fagaral xafi» xangi ratulel. 56. ГIагарлъиялълъул гьуинлъи гьоркьобакI цIцIикIкIанагIан цIцIикIкIунебила. fagar;iya:ul huin;i horpobaj ~iJanafan ~iJunebila. 57. ГIада-гIадамазе чваххун цIцIад байдал, дие горо бараб дуниял! fada-fadama#e xwa{un ~ad baydal, diye goro barab duniyal! 58. ГIадада бицараб рагIи – гIадада реххараб чIор. fadada bicarab rafi - fadada re{arab zor. 59. ГIадалаб бетIералълъ хIатIазе гIазаб кьолебила. fadalab beTera: \aTa#e fa#ab polebila. 60. ГIадалаб гъурщидасса цIцIодораб нус лълъикIаб. fadalab vur&idaSa ~odorab nus :ijab. 61. ГIадалаб заманалда гIакъилзабигицин гIадаллъулелила. fadalab #amanalda faqil#abigicin fadal;ulelila. 62. ГIадалав вехь хвани боцIцIуе рахIат, гIадалав ххан хвани ххалкъалълъе рахIат. fadalaw we% [wani bo~uye ra\at, fadalaw {an [wani {alqa:e ra\at. 63. ГIадалав гьудулассдасса гIакъилав тушманго лълъикIила. fadalaw hudulaSdaSa faqilaw tu^mango :ijila. Циги чиги цоцазе цIакъ рокьулел рукIун руго. Цицца чи ссундассаго цIунулев вукIун вуго. Гьессда асскIобе чIагояб жо къазе биччалеб букIун гьечIо. Цо нухалда чи кьижун вукIун вуго, ци жиндирго гIадаталда рекъон хъаравуллъуда букIун буго. ТIутI рещтIун буго чияссул надалда. Ццин бахъараб цицца тIотIода кьабураб квачIалълъ тIутIги хун буго, чиги хун вуго. cigi xigi coca#e `aq ropulel rujun rugo. ciCa xi SundaSago `unulew wujun wugo. heSda aSjobe zagoyab $o qa#e biXaleb bujun hezo. co nu[alda xi pi$un wujun wugo, ci $indirgo fadatalda reqon ]arawul;uda bujun bugo. TuT re&Tun bugo xiyaSul nadalda. Cin ba]arab ciCa ToToda paburab kwaza: TuTgi [un bugo, xigi [un wugo. 64. ГIадалав гIагарав чияссдасса цIцIодорав мадугьал анцIцIцIул лълъикIав. fadalaw fagaraw xiyaSdaSa ~odoraw maduhal an`~ul :ijaw. 65. ГIадалав ххан – къвачIинибе бараб цIулакьо. fadalaw {an - qwazinibe barab `ulapo. 66. ГIадалав чи ЯхIия гудрадаго гIанкIкI тарав. fadalaw xi ya\ya gudradago fanJ taraw. 67. ГIадалай бикаялдасса гIакъилай гъарабашго лълъикI. fadalay bikayaldaSa faqilay varaba^go :ij. 68. ГIадалнахги ххунчIрулги цоцалълъ журараб меххалълъ гIолохъанчи вукIунарев (кколарев). fadalna[gi {unzrulgi coca: $urarab me{a: folo]anxi wujunarew (Kolarew). 69. ГIадамаз гьагу бачани дуццаги гьагу баче, гIадамаз цIцIекIу бачани, дуццаги цIцIекIу баче. fadama# hagu baxani duCagi hagu baxe, fadama# ~eju baxani duCagi ~eju baxe. 70. ГIадамаз квешав чи вугилан абиялдасса кватIичIого хабалIе инго лълъикI. fadama# kwe^aw xi wugilan abiyaldaSa kwaTizogo [aba/e ingo :ij. 71. ГIадамаз къимат гьабулареб кIиго жойила дунялалда бугеб - сахлъиги эркенаб заманги. fadama# qimat habulareb jigo $oyila dunyalalda bugeb - sa[;igi erkenab #amangi. 72. ГIадамаз малълъухъе гьабуге, гьез гьабухъе гьабе. fadama# ma:u]e habuge, he# habu]e habe. 73. ГIадамаз ракь кваназабула – ракьалълъ гIадамал кваназарула. fadama# rap kwana#abula - rapa: fadamal kwana#arula. 74. ГIадамазда гъорлI вукIине лъайги кIудияб гIелму буго. fadama#da vor/ wujine ;aygi judiyab felmu bugo. 75. ГIадамазда гьоркьов - лълъикIав чи, живго ххутIидал – ххиянатчи. fadama#da horpow - :ijaw xi, $iwgo {uTidal - {iyanatxi. 76. ГIадамазда гьоркьой хханассул бика гIадай, балъда нахъа хъартил тIинчI гIадай. fadama#da horpoy {anaSul bika faday, ba;da na]a ]artil Tinz faday. 77. ГIадамазда чIалгIарав, Аллагьассда рихарав (ГIиссиназда чIалгIарав, чIахIиязда рихарав). fadama#da zalfaraw, allahaSda ri[araw (fiSina#da zalfaraw, za\iya#da ri[araw). 78. ГIадамаздасса ццевеги кIанцIуге, нахъаги ххутIуге. fadama#daSa Cewegi jan`uge, na]agi {uTuge. 79. ГIадамазе вокьарав Аллагьассеги вокьулев. fadama#e woparaw allahaSegi wopulew. 80. ГIадамазе баркала кьоларесс Аллагьассеги кьоларо. fadama#e barkala polareS allahaSegi polaro. 81. ГIадамазе – гьан, гьабзазе – рукьби, мискинассе – ратIа, бечедассе – бохх. fadama#e - han, hab#a#e - rupbi, miskinaSe - raTa, bexedaSe - bo{. 82. ГIадамазе гьойлъарав, гьабзазе ракьалъарав. fadama#e hoy;araw, hab#a#e rapa;araw. 83. ГIадамазе рикъзи кьеги, Аллагь, дие чорххое сахлъи кьеги. fadama#e riq#i pegi, allah, diye xor{oye sa[;i pegi. 84. ГIадамазул абундачаз азбаралълъул гъапу къани, къватIир ххутIулелила. fadama#ul abundaxa# a#bara:ul va_u qani, qwaTir {uTulelila. 85. ГIадамазул гIабдал – чанахъан, чуязул гIабдал – юргъачу. fadama#ul fabdal - xana]an, xuya#ul fabdal - yurvaxu. 86. ГIадамазул кIал бухьине кIолареб. fadama#ul jal bu%ine jolareb. 87. ГIадамазул хIурмат гьабунгутIи дурго хIурмат гьабунгутIи ккола. fadama#ul \urmat habunguTi durgo \urmat habunguTi Kola. 88. ГIадамазухъего иш гьабизе лIугьунге. fadama#u]ego i^ habi#e /uhunge. 89. ГIадамал ахIуд унелълъул - чехь унтарав, бахIарзал кьалде щолелълъул - мугъ унтарав. fadamal a\ud une:ul - xe% untaraw, ba\ar#al palde &ole:ul - muv untaraw. 90. ГIадамал бакъвараб бакIалдассан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа, хIарщулIан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа. fadamal baqwarab bajaldaSan ri:ani, mungi heniSan wi:a, \ar&u/an ri:ani, mungi heniSan wi:a. 91. ГIадамал берталълъ кьурдулел, цIцIогьор нуцIцIида кIулал ран ратидал кьурдулев. fadamal berta: purdulel, ~ohor nu~ida julal ran ratidal purdulew. 92. ГIадамал гурхIизеян гIодарай, давла щвезеян щокълъарай. fadamal gur\i#eyan fodaray, dawla &we#eyan &oq;aray. 93. ГIадамал гIемералълъуб чехь къай, чи гIемералълъуб бер къай. fadamal femera:ub xe% qay, xi femera:ub ber qay. 94. ГIадамал какуге, мунго веццуге. fadamal kakuge, mungo weCuge. 95. ГIадамал киналго лълъикIал рукIинаан, «кIиго рагIи» лълъиццаниги бицунаребани. fadamal kinalgo :ijal rujinaan, «jigo rafi» :iCanigi bicunarebani. 96. ГIадамал къулухъе къула, гIадамал рорххухъе ворхха. fadamal qulu]e qula, fadamal ror{u]e wor{a. 97. ГIадамал кьурдахъе кьурдизеги лъаларев, кьурдичIого чIчIезеги лъаларев. fadamal purda]e purdi#egi ;alarew, purdizogo Ze#egi ;alarew. 98. ГIадамал лъанагIан гьаби рокьулел рукIун руго. fadamal ;anafan habi ropulel rujun rugo. 99. ГIадамал ритIизаризе лIугьарав тIекъав чи – рагIад битIулареб тIил. fadamal riTi#ari#e /uharaw Teqaw xi - rafad biTulareb Til. 100. ГIадамал рихьизе – берал, нилIго рихьизе – матIу. fadamal ri%i#e - beral, ni/go ri%i#e - maTu. 101. ГIадамал хваралълъув хва, гIадамал рахъаралълъув вахъа. fadamal [wara:uw [wa, fadamal ra]ara:uw wa]a. 102. ГIадамал хваралълъув хвезеги вас вукIин талихI. fadamal [wara:uw [we#egi was wujin tali\. 103. ГIадамал хола, бахIарчи даим чIаго вукIуна. fadamal [ola, ba\arxi daim zago wujuna. 104. ГIадамалгун кьал ахIи ахIмакъассул иш буго. fadamalgun pal a\i a\maqaSul i^ bugo. 105. ГIадамалълъ вукIине лъаларессе дуниялги къваридаб, бетIербахъиги мукъссанаб. fadama: wujine ;alareSe duniyalgi qwaridab, beTerba]igi muqSanab. 106. ГIадамалI хва, гIадамалI вахъа (болI хва, болI вахъа). fadama/ [wa, fadama/ wa]a (bo/ [wa, bo/ wa]a). 107. ГIадамассдасса – боцIцIи, боцIцIудасса – цIарагI. fadamaSdaSa - bo~i, bo~udaSa - `araf. Кици буго гьадинаб божиялда тIад гIуцIцIараб, тIаде рачIунел балагьаздасса бетIергьаби цIунизе холебила хIайван. Гьединалго балагьаздасса хIайванал цIунизе бекулебила цIарагI. kici bugo hadinab bo$iyalda Tad fu~arab, Tade razunel balaha#daSa beTerhabi `ini#e [olebila \aywan. hedinalgo balaha#daSa \aywanal `uni#e bekulebila `araf. 108. ГIадамассе гIаданлъун вукIа, гьойда данде бацIлъун вукIа. fadamaSe fadan;un wuja, hoyda dande ba`;un wuja. 109. ГIадамассе къимат хIалтIи бихьун кье, хIайваналълъе къимат пайда бихьун кье. fadamaSe qimat \alTi bi%un pe, \aywana:e qimat _ayda bi%un pe. 110. ГIадамассе рецц – черххалда бахине нах. fadamaSe reC - xer{alda ba[ine na[. 111. ГIадамассул бищун кIудияб гIадаллъи – гIадамал жиндасса гIадалал ругилан ккей. fadamaSul bi&un judiyab fadal;i - fadamal $indaSa fadalal rugilan Key. 112. ГIадамассул квешлъи – гIамал кIодолъи, гIакдал квешлъи – рахь биччангутIи. fadamaSul kwe^;i - famal jodo;i, fakdal kwe^;i - ra% biXanguTi. 113. ГIадамассул ракI дуниял рагIалда, гIажалалълъул мугьру мугъалда нахъа. fadamaSul raj duniyal rafalda, fa$ala:ul muhru muvalda na]a. 114. ГIадамассул хIал кунеб, хIайваналълъул гьан кунеб. fadamaSul \al kuneb, \aywana:ul han kuneb. Кици буго къокъаб, тIассан пасихIаб букIиналда цадахъ жаниссан магIнаги гъваридаб. Абулеб буго, хIайван хьихьиялдассан асслияб мурад гьанги нахги бугеб гIадин, гIадан тIасса вищизе ккани, асслияб жо – хIал лълъикIлъи, тIабигIат лълъикIав вукIин бугилан. kici bugo qoqab, TaSan _asi\ab bujinalda cada] $aniSan mafnagi vwaridab. abuleb bugo \aywan %i%iyaldaSan aSliyab murad hangi na[gi bugeb fadin, fadan TaSa wi&i#e Kani aSliyab $o - \al :ij;i, Tabifat :ijaw wujin bugilan. 115. ГIадамассул чорххое гIелму – гIатIгояб гъотIое регьел. fadamaSul xor{oye felmu - faTgoyab voToye rehel. 116. ГIадамассулIан гуребила канлъи бихьулеб, рагIулIанила. fadamaSu/an gurebila kan;i bi%uleb, rafu/anila. 117. ГIадан адабалълъила берцин гьавулев. fadan adaba:ila bercin hawulew. 118. ГIадан басра гьави мунгоги басра гьави ккола. fadan basra hawi mungogi basra hawi Kola. 119. ГIадан басра гьавурассда басрияб къо бихьула. fadan basra hawuraSda basriyab qo bi%ula. 120. ГIадан божулареб гIумруялдасса цIунаги. fadan bo$ulareb fumruyaldaSa `unagi. 121. ГIадан ватани гIадамалълъ вукIа, гурев ватани хIайваналълъ вукIа. fadan watani fadama: wuja, gurew watani \aywana: wuja. 122. ГIадан вижулевила, гIакълу бачIунебила. fadan wi$ulewila, faqlu bazunebila. 123. ГIадан вихьун чучуге, чи вихьун рагIи бицунге. fadan wi%un xuxuge, xi wi%un rafi bicunge. 124. ГIадан вукIуневила богIолI гьоло гIадавги гьалилI сусур гIадавги. fadan wujunewila bofo/ holo fadawgi hali/ susur fadawgi. 125. ГIадан гогь гьавулебги – боцIцIи, пашман гьавулебги – боцIцIи. fadan goh hawulebgi - bo~i, _a^man hawulebgi - bo~i. 126. ГIадан гурев чияссда жо малълъи – лълъеда бикIараб накъищ. fadan gurew xiyaSda $o ma:i - :eda bujarab naqi&. 127. ГIадан гIадамассде кколевила, мегIер мегIералде кколаребила. fadan fadamaSde Kolewila, mefer meferalde Kolarebila. 128. ГIадан гIадамассе – матIу. fadan fadamaSe - maTu. 129. ГIадан гIакълуялълъ берцин гьавула, ретIел букъиялълъ берцин гьабула. fadan faqluya: bercin hawula, reTel buqiya: bercin habula. 130. ГIадан – гIатIгояб жо. fadan - faTgoyab $o. 131. ГIадан гIодов ватуларев, вичун восизе щоларев. fadan fodow watularew, wixun wosi#e &olarew. 132. ГIадан гIорцIцIидал гIергIедулевила, хIайван бакъидал гIергIедулебила. fadan for~idal ferfedulewila, \aywan baqidal ferfedulebila. 133. ГIадан квегъе берцинаб рагIиялълъ, бугъа квегъе биццатаб тIилалълъ. fadan kweve bercinab rafiya:, buva kweve biCatab Tila:. 134. ГIадан кколеб жо – бугIа, гIадан чIвалеб жо – чIагIа. fadan Koleb $o - bufa, fadan zwaleb $o - zafa. 135. ГIадан кIиго нухалълъила загIипав вукIунев, вижулагоги холагоги. fadan jigo nu[a:ila #afi_aw wujunew, wi$ulagogi [olagogi. 136. ГIадан рагIуцца реххулев, хIайван чохьоцца реххулеб. fadan rafuCa re{ulew, \aywan xo%oCa re{uleb. 137. ГIадан ракьулIе уна, хIайван хьагинибе уна, лълъикIаб иш нахъе ххутIула. fadan rapu/e una, \aywan %aginibe una, :ijab i^ na]e {uTula. 138. ГIадан рекIинчIеб чуги, чи кIалъачIей ясги рукIунарел. fadan rejinzeb xugi, xi ja;azey yasgi rujunarel. 139. ГIадан рикIкIун – хIал, хIайван рикIкIун – лIар. fadan riJun - \al, \aywan riJun - /ar. 140. ГIадан ссипат-ссураталълъ гуревила берцин гьавулев, захIматалълъила. fadan Si_at-Surata: gurewila bercin hawulew, #a\mata:ila. 141. ГIадан хола, гIаданлъи нахъе ххутIула, хIама хола, тIом гурони ххутIуларо. fadan [ola, fadan;i na]e {uTula, \ama [ola, Tom guroni {uTularo. 142. ГIадан хIал бихьун вецце, хIайван гьан бихьун бецце. fadan \al bi%un weCe, \aywan han bi%un beCe. 143. ГIадан чIвалеб жо – чIухIи. fadan zwaleb $o - zu\i. 144. ГIадан щола ракIалълъ къотIараб бакIалде. fadan &ola raja: qoTarab bajalde. 145. ГIаданилан гIадамалълъ гурев, хIайванилан хIайваналълъ гурев. fadanilan fadama: gurew, \aywanilan \aywana: gurew. 146. ГIаданлъи гьабизе кватIун букIунареб. fadan;i habi#e kwaTun bujunareb. 147. ГIаданлъи гьечIеб черхх – чилъи гьечIеб ракI. fadan;i hezeb xer{ - xi;i hezeb raj. 148. ГIаданлъи гьечIелълъуб гьудуллъи чIчIолареб. fadan;i heze:ub hudul;i Zolareb. 149. ГIаданлъиялълъулги цIезе бегьулебила таргьа. fadan;iya:ulgi `e#e behulebila tarha. 150. Чачаналде гьирихъ ун рукIанила гIандал. xaxanalde hiri] un rujanila fandal. 151. ТIад руссун рачIунаго, цо росулI гьезда кверкьаби ратанила. Цадахъ рукIаразда цоясс абунила - «Гьаниб хвел ккун бихьула. РачIа нилIецца, гьагъазда зигараги бан, гIаданлъи гьабизин». Tad ruSun razunago, co rosu/ he#da kwerbaqi ratanila. cada] rujara#da coyaS abunila - «hanib [wel Kun bi%ula. raza ni/eCa hava#da #igaragi ban, fadan;i habi#in». 152. ГIаданлъиялълъул цIун буго! ГIаданлъиялълъул! – ан абунила гьесс гьалмагъзабазда… fadan;iya:ul `un bugo! fadan;iya:ul! - an abunila heS halmav#aba#da... 153. ГIадат бугила, бетIергьанчиясс бачунеб хIама гIадин, бачухъе билълъунеб жо (Гьабухъе букIунеб жойила гIадат). fadat bugila beTerhanxiyaS baxuneb \ama fadin baxu]e bi:uneb $o (habu]e bujuneb $oyila fadat). 154. ГIадлу – алжаналълъул кIул. fadlu - al$ana:ul jul. 155. ГIадлу – багIараб месед. fadlu - bafarab mesed. 156. ГIадлу гьечIеб рокъоб рекъел букIунареб. fadlu hezeb roqob reqel bujunareb. 157. ГIадлу гьечIеб росулI гIакIа гIемераб ахIула. fadlu hezeb rosu/ faka femerab a\ula. 158. ГIадлу гьечIев хIаким – рехъен бихьуларев вехь. fadlu hezew \akim - re]en bi%ularew we%. 159. ГIадлу гьечIев цIцIалдохъанассул цIцIар гIемер ахIизе ккола. fadlu hezew ~aldo]anaSul ~ar femer a\i#e Kola. 160. ГIадлу цIцIикIкIаралълъуб цIцIогь дагьаб. fadlu ~iJara:ub ~oh dahab. 161. ГIадлуялълъулI гIажал гьечIеб, вуххиялълъул ххайир гьечIеб. fadluya:u/ fa$al hezeb, wu{iya:ul {ayir hezeb. 162. ГIажал лъала ганчIида. fa$al ;ala ganzida. МагIарулазул гIадат буго, жал мурадалде щолищан бихьизе, «бичч-бакъ» реххулеб. Алмасил МухIумиццаги реххун буго «бичч-бакъ», чанцIцIул рехханиги, гьессул анищалда рекъон ккун гьечIо эххеде реххараб гамачI. Цинги Алмасиласс гамачI, гьадал рагIабиги абун, хьуризабун буго. mafarula#ul fadat bugo, $al muradalde &oli&an bi%i#e, «biX-baq» re{uleb. almasil mu\umiCagi re{un bugo «biX-baq», xan~ulni re{anigi, heSul ani&alda reqon Kun hezo e{ede re{arab gamaz. cingi almasilaS gamaz, hadal rafabi abun, %uri#abun bugo. 163. ГIажалалда гъураб меххалълъ гIункIкIал кутулгун расандулел. fa$alalda vurab me{a: funJal kutulgun rasandulel. 164. ГIажалалде гъейгун, болъон гохIде бахунебила. fa$alalde veygun bo;on go\de ba[unebila. 165. ГIажалан абурассда унтиян абулеб, унтиян абурассда толоян абулеб. fa$alan aburaSda untiyan abuleb, untiyan aburaSda toloyan abuleb. 166. ГIажамиясс къуръан гIадин гьабила, къулгьу! – ян абурабила гIарабалълъ бечIчIизе букIунареб гIакдада. fa$amiyaS qur'an fadin habila, qulhu! - yan aburabila faraba: beZi#e bujunareb fakdada. 167. ГIазаб чIамичIого, мурадалде щоларел. fa#ab zamizogo muradalde &olarel. 168. ГIаздатIаги лъалкI толарев. fa#daTagi ;alj tolarew. 169. ГIазукь букIаниги дерец тIегь ккола, тIалтIа бижаниги хъутур чIахI ккола. fa#up bujanigi derec Teh Kola, TalTa bi$anigi ]utur za\ Kola. 170. ГIазулI вачIунге, гьоролI вачIаян абулебила цIцIогьорасс гьалмагъассда. fa#up wazunge, horo/ wazayan abulebila ~ohoraS halmavaSda. 171. ГIазулIги хIур букIунеб. fa#u/gi \ur bujuneb. 172. ГIайиб бадибе гьаби бадибе рецц гьабиялдасса нусцIцIул лълъикIаб. fayib badibe habi badibe reC habiyaldaSa nus~ul :ijab. 173. ГIайиб буго вокьуларев чияссда букIунеб жо. fayib bugo wopularew xiyaSda bujuneb $o. 174. ГIайиб буго къурассда букIунеб жо. fayib bugo quraSda bujuneb $o. 175. ГIайиб гьечIев гьудул ватуларев, багьана гьечIей лълъади йикIунарей. fayib hezew hudul watularew, bahana hezey :adi yijunarey. 176. ГIайиб гьечIессе кьураб нагIана дудего буссунебила. fayib hezeSe purab nafana dudego buSunebila. 177. ГIайиб ГIумарида – хъапасал дида. fayib fumarida - ]a_asal dida. 178. ГIайиб камурав чи вукIунарев, цо рахъ камичIеб хIалтIи букIунареб. fayib kamuraw xi wujunarew, co ra] kamizeb \alTi bujunareb. 179. ГIайиб кколареб черххги букIунареб, гIазу балареб мегIерги букIунареб. fayib Kolareb xer{gi bujunareb, fa#u balareb mefergi bujunareb. 180. ГIайиб кколарев чи вукIунарев, гIамал гьечIеб черхх букIунареб. fayib Kolarew xi wujunarew, famal hezeb xer{ bujunareb. 181. ГIайиб кколарей чIчIужу ялагьулев, чIчIужу гьечIого ххутIулев. fayib Kolarey Zu$u yalahulew, Zu$u hezogo {uTulew. 182. ГIайиб кIалалда кколеб, зар бетIералда щолеб. fayib jalalda Koleb, #ar beTeralda &oleb. 183. ГIайиб – къватIиб, дун – рокъов. fayib - qwaTib, dun - roqow. 184. ГIайиб лълъилго кколебила, мунагь ккезе вукIунгейила. fayib :ilgo Kolebila, munah Ke#e wujungeyila. 185. ГIайибал рорцани меххелалда жаниб 200 россассда 200 чIчIужуялда кколебила. РорцинчIого тани, цониги кколаребила. fayibal rorcani me{elalda $anib 200 roSaSda 200 Zu$uyalda Kolebila. rorcinzogo tani, conigi Kolarebila. 186. ГIайибалда къвал барав, мунагьалда кьан барав. fayibalda qwal baraw, munahalda pan baraw. 187. ГIайибалдасса къадарабги гIила букIунебила. fayibaldaSa qadarabgi fila bujunebila. 188. ГIайибалдасса нечоларев, мунагьалдасса хIинкъуларев. fayibaldaSa nexolarew, munahaldaSa \inqularew. 189. ГIайибалълъ чехь бихъулареб носоцца гурони. fayiba: xe% bi]ulareb nosoCa guroni. 190. ГIайибав тамихIалълъукьа хIинкъулевила, гIайиб гьечIев къисматалълъукьа хIинкъулевила. fayibaw tami\a:upa \inqulewila, fayib hezew qismata:upa \inqulewila. 191. ГIака балагье рахь-нахалълъе лълъикIаб, чIчIужу ялагье гIамал-ххассият лълъикIай. faka balahe ra%-na[a:e :ijab, Zu$u yalahe famal-{aSiyat :ijay. 192. ГIака бечIчIизе лъаларелълъ азбар (лолон) гьетIараб бугилан абурабила. faka beZi#e ;alare: a#bar (lolon) heTarab bugilan aburabila. 193. ГIака бечIчIулелилан хIама бечIчIулел ратугеги. faka beZulelilan \ama beZulel ratugegi. 194. ГIака бичаравги, туххум таравги чи бечелъуларо. faka bixarawgi, tu{um tarawgi xi bexe;ularo. 195. ГIака биче бечIчIизе букIунареб, ригьин биххе дургун хIал рекъолареб. faka bixe beZi#e bujunareb, rihin bi{e durgun \al reqolareb. 196. ГIака бокьула нахулаб, гIадан вокьула гIамал лълъикIав. faka bopula na[ulab, fadan wopula famal :ijaw. 197. ГIака босейила рахьдалаб, чIчIужу ячейила гIамал берцинай. faka boseyila ra%dalab, Zu$u yaxeyila famal bercinay. 198. ГIака босилалде бокь гьабе, чIчIужу ячиналде рукъ гьабе. faka bosilalde bop habe, Zu$u yaxinalde ruq habe. 199. ГIака гьечIеб къайи – гIи гьечIеб ручун. faka hezeb qayi - fi hezeb ruxun. 200. ГIака какун нах кварай, росс какун рукъ кварай. faka kakun na[ kwaray, roS kakun ruq kwaray. 201. ГIака кьанагъдичIони кьандиб жо бугъилги багъарулареб. faka panavdizoni pandib $o buvilgi bavarulareb. 202. ГIака лъала лъабцIцIул къинлъидал, вас лъала эмен херлъидал. faka ;ala ;ab~ul qin;idal, was ;ala emen [er;idal. 203. ГIака ххаххаралълъул – бече хIалакъаб, кето кьариялълъул – хIама хIалакъаб. faka {a{ara:ul - bexe \alaqab, keto pariya:ul - \ama \alaqab. 204. ГIака чIчIегIераб бугониги, рахь хъахIаб букIуна. faka Zeferab bugonigi, ra% ]a\ab bujuna. 205. ГIакайилан ккун хIама бечIчIарай. fakayilan Kun \ama beZaray. 206. ГIакарумагIарда гIодоб чIчIараб оцгIанаб гIазу бугони, Ххунзахъ рекьи хъукьлъулареб. fakarumafarda fodob Zarab ocfanab fa#u bugoni, {un#a] repi ]up;ulareb. 207. ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран. fakdalgun ni/er bugeb $o - daran. 208. ГIакдацца гуребила рахь кьолеб, чуруццайила. fakdaCa gurebila ra% poleb, xuruCayila. 209. ГIакдацца рачIчI хьвагIичIони бугъа ххадуб унареб. fakdaCa raZ %wafizoni buva {adub unareb. 210. ГIакъил гIадада кIалъаларев. faqil fadada ja;alarew. 211. ГIакъил гIодове виччан кIалъала, гIабдал ахIдола. faqil fodowe wiXan ja;ala, fabdal a\dola. 212. ГIакъил кици тIамун кIалъала, гIабдаласс гьедун бицуна. faqil kici Tamun ja;ala, fabdalaS hedun bicuna. 213. ГIакъил къадруялде вахани мегIергIан кьуруларев, гIабдал даражаялде вахани хIотол сум гIадин гьетIарулев. faqil qadruyalde wa[ani meferfan purularew, fabdal dara$ayalde wa[ani \otol sum fadin heTarulew. 214. ГIакъил мекъи ккани, гIемерал мекъи ккола. faqil meqi Kani, femeral meqi Kola. 215. ГIакъил тIоццеве гIакъилассда лъала, гIабдал тIоццеве гIиссинлъималазда лъала. faqil ToCewe faqilaSda ;ala, fabdal ToCewe fiSin;imala#da ;ala. 216. ГIакъилчи хвани нахъе лълъикIаб цIцIар ххутIула, гIалимчи хвани лълъикIаб асар ххутIула. faqilxi [wani na]e :ijab ~ar {uTula, falimxi [wani :ijab asar {uTula. 217. ГIакъилаб бетIералълъе тIил къваригIунареб. faqilab beTera:e Til qwarifunareb. 218. ГIакъилаб гьой гIадада хIапдолареб, гIакъилав чи гIадада чвархъоларев. faqilab hoy fadada \a_dolareb, faqilaw xi fadada xwar]olarew. 219. ГIакъилаб жо бицине ххалатаб калам къваригIунаро. faqilab $o bicine {alatab kalam qwarifunaro. 220. ГIакъилав мискинчи къого бечедассдасса лълъикIав. faqilaw miskinxi qogo bexedaSdaSa :ijaw. 221. ГIакъилав чияссул гIантал лъималги рукIунел, гIантав чияссул гIакъилалги рукIунел. faqilaw xiyaSul fantal ;imalgi rujunel, fantaw xiyaSul faqilalgi rujunel. 222. ГIакъилавлъун вукIине квалквал гьабула гIакъилавлъун вукIине жигар бахъиялълъ. faqilaw;un wujine kwalkwal habula faqilaw;un wujine $igar ba]iya:. 223. ГIакъилал руцIцIун чIчIарабги заман бачIунебила. faqilal ru~un Zarabgi #aman bazunebila. 224. ГIакъилал эбел-инссулги рукIине бегьулелила гьагал лъимал. faqilal ebel-inSulgi rujine behulelila hagal ;imal. 225. ГIакъиласс бихьараб-рагIараб бицуна, гIабдаласс чохьол бицуна. faqilaS bi%arab-rafarab bicuna, fabdalaS xo%ol bicuna. 226. ГIакъиласс гIакъилай чIчIужу ялагьула, гIабдаласс гьумер берцинай ялагьула. faqilaS faqilay Zu$u yalahula, fabdalaS humer bercinay yalahula. 227. ГIакъиласс магIардаги ах гьабулеб, гIабдаласс гIанкIудул ханазул тIамуниги лал бокъинабулареб. faqilaS mafardagi a[ habuleb, fabdalaS fanjudul [ana#ul Tamunigi lal boqinabulareb. 228. ГIакъиласс ургъун бицуна, гIабдаласс кьвагьун биччала. faqilaS urvun bicuna, fabdalaS pwahun biXala. 229. ГIакъиласс цо чIчIужу ячуней, гIабдаласс чан щваниги ячуней. faqilaS co Zu$u yaxuney, fabdalaS xan &wanigi yaxuney. 230. ГIакъилассда малълъе, гIабдал гурони вуххуге. faqilaSda ma:e, fabdal guroni wu{uge. 231. ГIакъилассдасса ватIалъуге, гIабдалассда нахъвилълъунге. faqilaSdaSa waTa;uge, fabdalaSda na]wi:unge. 232. ГIакъилассдассан гIакълу щола, гIабдалассдассан щибго щоларо. faqilaSdaSan faqlu &ola, fabdalaSdaSan &ibgo &olaro. 233. ГIакъилассе вокьула жиндасса гIакъилав чи, хханассе бокьула бищунго гIакъилавлъун живго вукIине. faqilaSe wopula $indaSa faqilaw xi, {anaSe bopula bi&ungo faqilaw;un $iwgo wujine. 234. ГIакъилассе – ишан, гIабдалассе – бугI-бугI. faqilaSe - i^an, fabdalaSe - buf-buf. 235. ГIакъилассе къварилъи – гIабдалассе роххел. faqilaSe qwari;i - fabdalaSe ro{el. 236. ГIакъилассул газа кьурдаги рекIунеб, лълъим лъалессул квер гIордаги балеб. faqilaSul ga#a purdagi rejuneb, :im ;aleSul kwer fordagi baleb. 237. ГIакъилассул гIакълу къалмиццаги бицунеб. faqilaSul faqlu qalmiCagi bicuneb. 238. ГIакъилассул гIакълу рекIелI букIуна, гIабдалассул гIакълу мацIцIалда букIуна. faqilaSul faqlu reje/ bujuna, fabdalaSul faqlu ma~alda bujuna. 239. ГIакъилассул къассдал дагьал, къассдал гIемерассул гIакълу дагьаб. faqilaSul qaSdal dahal, qaSdal gemeraSul faqlu dahab. 240. ГIакъилассда рагIи рагIал баккарабго бичIчIулеб, гIабдалассда бугIизе кколеб. faqilaSda rafi rafal baKarabgo biZuleb, fabdalaSda bufi#e Koleb. 241. ГIакъилассул ссабру кIудияб, жагьилассул ццин ххеххаб. faqilaSul Sabru judiyab, $ahilaSul Cin {e{ab. 242. ГIакъиласс ункъо жо гьитIинаблъун рикIкIунареб - цIаги, унтиги, тушманлъиги, налъиги. faqilaS unqgo $o hiTinab;un riJunareb - `agi, untigi, tu^man;igi, na;igi. 243. ГIакъилассул хвел цо буго. faqilaSul [wel co bugo. 244. ГIакъилассул хIалтIи гIемераб, гIабдалассул чIанда гIемераб. faqilaSul \alTi femerab, fabdalaSul zanda femerab. 245. ГIакъилги къосунев, гIабдалассулги цIцIодораб жо кколеб. faqilgi qosunew, fabdalaSulgi ~odorab $o Koleb. 246. ГIакъилгун ургъун давла босе, гIабдалгун ургъун балагь тIаде цIцIаге. faqilgun urvun dawla bose, fabdalgun urvun balah Tade ~age. 247. ГIакъилзаби гIемерлъиялълъ гIакълу босизе чиго гьечIого ххутIун ругила. faqil#abi femer;iya: faqlu bosi#e xigo hezogo {uTun rugila. 248. ГIакъиллъи ботIролI бугев ссабруялда хьвадула, ссабруялда хьвадарав мурадалде вахуна. faqil;i boTro/ bugew Sabruyalda %wadula, Sabruyalda %wadaraw muradalde wa[una. 249. ГIакъиллъи тIаде ккола, ахIмакълъи гъоркье ккола. faqil;i Tade Kola, a\maq;i vorpe Kola. 250. ГIакълу бугел кантIулел, жо бичIчIулез росулел жалила кицаби. faqlu bugel kanTulel, $o biZule# rosulel $alila kicabi. 251. ГIакълу бикъулареб, я гIодобе бортулареб. faqlu biqulareb, ya fodobe bortulareb. 252. ГIакълу бикьулелълъул бакъалда тарав, намус бикьулелълъул гьоркьов ххутIарав. faqlu bipule:ul baqalda taraw, namus bipule:ul horpow {uTaraw. 253. ГIакълу бикьулелълъул нахъа ххутIарай, ххабар бикьулелълъул ццее кIанцIарай. faqlu bipule:ul na]a {uTaray, {abar bipule:ul Ceye jan`aray. 254. ГIакълу ботIрол кIодолъиялда бараб букIунебани, ганщил бищунго кIудияб букIинаанила. faqlu boTrol jodo;iyalda barab bujunebani, gan&il bi&ungo judiyab bujinaanila. 255. ГIакълу бугев инссуцца вас бергьине толарев. faqlu bugew inSuCa was berhine tolarew. 256. ГIакълу бугила нилIее къваригIараб меххалълъ чияхъ батулеб, чияе къваригIараб меххалълъ нилIехъ батулеб жо. faqlu bugila ni/eye qwarifarab me{a: xiya] batuleb, xiyaye qwarifarab me{a: ni/e] batuleb $o. 257. ГIакълу гьаре, боцIцIи гьаруге. faqlu hare, bo~i haruge. 258. ГIакълу гьечIеб бетIер, чIобогояб ракI, гIадалал ххиялаз хвана гIадада. faqlu hezeb beTer, zobogoyab raj, fadalal {iyala# [wana fadada. 259. ГIакълу гьечIеб бетIералда жаниб бугеб гIелму – бетIер гьечIеб къаркъалаялда лъураб тIагъур. faqlu hezeb beTeralda $anib bugeb felmu - beTer hezeb qarqalayalda ;urab Tavur. 260. ГIакълу гьечIеб къаркъала – къебелъухъ лълъадаричIеб нус. faqlu hezeb qarqala - qebe;u] :adarizeb nus. 261. ГIакълу гьечIеб гьавали гьаваялда хьвадула. faqlu hezeb hawali hawayalda %wadula. 262. ГIакълу гьечIев «гIакъил», бо гьечIев «ццевехъан». faqlu hezew «faqil», bo hezew «Cewe]an» 263. ГIакълу гьечIев васассдасса гьевги хун гьабураб бахъухъ лълъикIаб. faqlu hezew wasaSdaSa hewgi [un haburab ba]u] :ijab. 264. ГIакълу гьечIевгIан чи мекъав вукIуневила. faqlu hezewfan xi meqaw wujunewila. 265. ГIакълу гьечIей бика – рахь гьечIеб гIака. faqlu hezey bika - ra% hezeb faka. 266. ГIакълу гьечIел данде чIвагеги, гIажал щварал цадахъ ккогеги. faqlu hezel dande zwagegi, fa$al &waral cada] Kofogegi. 267. ГIакълу гьечIессе гIакълу кьоге. faqlu hezeSe faqlu poge. 268. ГIакълу гьечIессул берал гIемер гIодулел. faqlu hezeSul beral femer fodulel. 269. ГIакълу гьикъизе херав чи гьечIони, хераб хIохьода гьикъе. faqlu hiqi#e [eraw xi hezoni, [erab \o%oda hiqe. 270. ГIакълу гIемерассул калам дагьаб. faqlu femeraSul kalam dahab. 271. ГIакълу гIолеб гьечIони, ганчIида гьикъунги, гьикъичIого тоге. faqlu foleb hezoni, ganzida hiqungi, hiqizogo toge. 272. ГIакълу дагьал, цIцIалукагътал щварал жал рихьулахха, дир лъимал, нуж! (Ххунзахъа Аталазул Катуралълъ абурал кицилъун лIугьарал рагIаби). faqlu dahal, ~alukavtal &waral $al ri%ula{a, dir ;imal, nu$! ({un#a]a atala#ul katura: abural kici;un /uharal rafabi). 273. ГIакълу дагьассул мацIцI кIудияб. faqlu dahaSul ma~ judiyab. 274. ГIакълу дагьассул рагIи гIемераб. faqlu dahaSul rafi femerab. 275. ГIакълу заргIанав – гIамал зобгIанав. faqlu #arfanaw - famal #obfanab. 276. ГIакълу – къокъаб, чIанда – ххалатаб. faqlu - qoqab, zanda - {alatab. 277. ГIакълу къокъассул мацIцI ххалатаб. faqlu qoqaSul ma~ {alatab. 278. ГIакълу кьеги къвачIа цIун, къвачIа кьеги гIарцул цIун. faqlu pegi qwaza `un, qwaza pegi farcul `un. 279. ГIакълу ресалълъ малълъулеб. faqlu resa: ma:uleb. 280. ГIакълу саналI гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu sana/ gurebila bujuneb, boTro/ila. 281. ГIакълу тIагърикь гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu Tavrip gurebila bujuneb, boTro/ila. 282. ГIакълу тIатине ссабруги кьеги, ссабру алжаналълъул кIул букIин лъазе гъваридаб пикруги кьеги. faqlu Tatine Sabru pegi, Sabru al$ana:ul jul bujin ;a#e vwaridab _ikrugi pegi. 283. ГIакълу – ццебе, ццин – нахъе. faqlu - Cebe, Cin - na]e. Цо росулI гIумру гьабулел рукIанила эбелги васги. Ххеххгого россги хун, гьев васассе гIумру бичарай гIадан йикIанила эбел. Балугълъиялде вас вахиндал, чIчIужу ячине йигин, дир вас, диеги кумек букIинеян лIугьанила эбел. Вас разилъулев вукIинчIила. Эбелни тIасса йичIичIелълъул, цо релълъаралда рекъараб бакIги тIасса бищун, чIчIужуги ячанила, бертинги гьабунила. Гьедин дагьал моцIцIал анила. co rosu/ fumru habulel rujanila ebelgi wasgi. {e{gogo roSgi [un, hew wasaSe fumru bixaray fadan yijanila ebel. baluv;iyalde was wa[indal, Zu$u yaxine yigin, dir was, diyegi kumek bujineyan /uhanila ebel. was ra#i;ulew wujinzila. ebelni TaSa yizize:ul, co re:aralda reqarab bajgi TaSa bi&un, Zu$ugi yaxanila, bertingi habunila. hedin dahal mo~al anila. Цо къоялълъ, сапаралдасса вуссиндал, гьессда эбелалълъул берал риччун рихьанила. Щиб-кинилан цIеххедал, щибго гьечIин, херал руччабазул берал чваххулин, гьедин батилилан, тIасса вихьизавунила гьелълъ вас. КIиабилеб къоялълъги гьединго кканила. Щаклъун васасс ххал ккунила. Эбелалълъ цо абулила, нусалълъ анцIго гIезабулила… co qoya:, sa_araldaSa wuSindal, heSda ebela:ul beral riXun ri%anila. &ib-kinilan `e{edal, &ibgo hezin, [eral ruXaba#ul beral xwa{ulin, hedin batilin, TaSa wi%i#awunila he: was. jiabileb qoya:gi hedin Kanila. &ak;un wasaS {al Kunila. ebela: co abulila, nusa: an`go fe#abulila... Гьа, гьадинищхха иш букIарабилан, ццин бахъанила васассул. Дицца дуда абунин дие лълъади ячунгейилан, дуццаго ячанин, гьанже лълъикIго рукIайин, дун нужеда тIокIав вихьулариланги абун, унаго-унаго вас рикIкIаде, цо базаргабазул росулIе щванила. Гьенив цо бечедав базарганасс жиндирго ххамил тукада вичаризе тIамунила. Гьедин анила чанго сон. ha, hadini&{a i^ bujarabilan, Cin ba]anila wasaSul. diCa duda abunin diye :adi yaxungeyila, duCago yaxanin, han$e :ijgo rajayin, dun nu$eda Tojaw wi%ularilangi abun, unago-unago was riJade, co ba#argaba#ul rosu/e &wanila. heniw co bexedaw ba#arganaS $indirgo {amil tukada wixari#e Tamunila. hedin anila xango son. Цо къоялълъ базарганассда гьав, кIалдиб полопги бан, квешго лIугьун ватанила. Щиб-кинилан гьикъидал, валагьин, эбелги ракIалде щванин, гьелълъ тамахлъизе гьавунилан бицанила. co qoya: ba#arganaSda haw, jaldib _olo_gi ban, kwe^go /uhun watanila. &ib-kinilan hiqidal, walahin, ebelgi rajalde &wanin, he: tama[;i#e hawunilan bicanila. «Рокъове тIад вуссине бокьиларищ дуе?» – ян цIехханила базарганасс. Бокьилаанилан жаваб кьунила гьассги. РекIине чуги кьунила, базе ярагъги кьунила. ЛълъикIаб бихьун ххамил ххулжалги цIезарунила. «Дуда тIад вуссине ракIалде ккани, эбелги лълъадиги цадахъ рачун, гьанивеги вачIа. Сордо кIудияссул гIакълуги цIцIикIкIарабилан абулелълъул, цо дихъги гIенеккеян, - абунила базарганасс, - росулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. Гьоболассда къваригIел гьечIеб жоги цIеххоге, ццин нахъе ккезабуни, мун мекъссаги ккеларо. Гьанже дуе нух битIаги», – ян гьессул квер босанила. «roqowe Tad wuSine bopilari& duye?» - yan `e{anila ba#arganaS. bopilaanilan $awab punila haSgi. rejine xugi punila, ba#e yaravgi punila. :ijab bi%un {amil {ul$algi `e#arunila. «duda Tad wuSine rajalde Kani, ebelgi :adigi cada] raxun, haniwegi waza. sordo judiyaSul faqlugi ~iJarabilan abule:ul, co di]gi feneKeyan, - abunila ba#arganaS, - rosu/e &we#e res bujago, qwaTiwgi Zoge, rosu riJad bujin ;alago, qaSi nu[dagi wa]unge. hobolaSda qwarifel hezeb $ogi `e{oge, Cin na]e Ke#abuni, mun meqSagi Kelaro. han$e duye nu[ biTagi», - yan heSul kwer bosanila. Гьедин гьасс ватIаналде сапар бухьанила. Гьессда нухда цадахъ кканила, варанабазда лъун гIемераб къайи-къоногун, гьеб бичизе унел базаргаби. ЛълъикIго ссваканги рукIун, сордоги щолеб букIун, цо ссанагIатаб бакIалда рещтIине ракIалде кканила къайицадахъазда. Гьасс абунила, жинда гьабзазул хIапиги хIелказул гIегIедиги рагIанин, гIагардегIан росу батиялда щаклъи гьечIин, гьанир рещтIун лълъикI гурилан. Васассул гIакълуялълъухъ гьел гIенеккичIила, гьенирго чIчIанила. hedin haS waTanalde sa_ar bu%anila. heSda nu[da cada] Kanila, waranaba#da ;un femerab wayi-qonogun, heb bixi#e unel ba#argabi. :ijgo Swakan rujun, sordogi &oleb bujun, co Sanafatab bajalda re&Tine rajalde Kanila qayicada]a#da. haS abunila, $inda hab#a#ul \a_igi \elka#ul fefedigi rafanin, fagardefan rosu batiyalda &ak;i hezin, hanir re&Tun :ij gurilan. wasaSul faqluya:u] hel feneKizila, henirgo Zanila. Вас росулIе вилълъанила. Саламги кьун, росдал годекIаниве щванила. Рокъо-рокъоре гIадамалги ун, цо чи ххутIанила, кагътида тIад лъураб гьанал кесекги кодоб ккун, гьенивго. Гьобол вугищан гьикъанила гьесс васассда. ГьечIилан гьессги жаваб кьунила. ХIинкъиларев ватани, дида цадахъ вилълъаян абунила гьев чиясс. Щай хIинкъулев, мунги дунго гIадав гIадан гурищилан, ххадуб чуги цIцIан, гьавги гьессда ххадув анила. was rosu/e wi:anila. salamgi pun, rosdal godejaniwe &wanila. roqo-roqore fadamalgi un, co xi {uTanila, kavtida Tad ;urab hanal kesekgi kodob Kun, heniwgo. hobol wugi&an hiqanila heS wasaSda. hezilan heSgi $awab punila. \inqilarew watani, dida cada] wi:ayan abunila hew xiyaS. &ay \inqulew, mungi dungo fadaw fadan guri&ilan, {adub xugi ~an, hawgi heSda {aduw anila. Азбаралълъуре лIугьиндал, гьой гIадин раххссидаги бан, хIапулей йигила чIчIужугIадан. БетIергьанчиясс гьей раххссидасса йичанила. Жанире щванила. Таххида тIад, гIадан гIадин, бегун бугила гьой. Гъой чIчIужуялълъ гьоболассул чодуе кIалцIи-ххерги банила. Доб гьанги белъун, ххинкIалги гьарунила, квенги гьазда ццебе лъунила. Цинги рукъалълъул бетIергьанасс чIчIужугIадан йикIаралълъуйго юхьанила. Ххадур кIиялгоги квананила, ххутIараб ракьа-макъарги чуриги дой чIчIужуялълъеги кьунила. a#bara:ure /uhindal, hoy fadin ra{Sidagi ban, \a_uley yigila Zu$ufadan. beTerhanxiyaS hey ra{SidaSa yixanila. $anire &wanila. ta{ida Tad, fadan fadin, begun bugila hoy. voy Zu$uya: hobolaSul xoduye jal`i-{ergi banila. dob hangi be;un, {injalgi harunila, kwengi ha#da Cebe ;unila. cingi ruqa:ul beTerhanaS Zu$ufadan yijara:uygo yu%anila. {adur jiyalgogi kwananila, {uTarab rapa-maqargi xurigi doy Zu$uya:egi punila. Къасси макьуги щвечIила васассда, кин букIаниги хIал лъазеги течIила, радал вахъун нухда ине къачIанила. Додинго кваназеги гьавун, инехъин вукIарав вас гьоболасс тIад вуссине гьавунила. - Дуда гьаниб щибго гIажаиблъи гьабизе жого бихьичIищ? – ан гьикъанила. - Валлагь, дуда берцин бихьараб гуреяб, дида щибго гIажаибаб жо бихьичIо, – ян чIчIанила гьав. - Гьанже дида ххадув вачIа, – ян цо гвенд бихьизабунила гьасс гьоболассда. Цо рахъалде бутIрул, цоги рахъалде къаркъалаби ран ругила чIварал чагIазул. – КъваригIел гьечIеб жо цIеххон вукIарабани, мунги гьазда асскIов вукIинаан. Мун цIцIодорав чи вихьула, дицца дуда кинабго бицина. qaSi mapugi &wezila wasaSda, kin bujanigi \al ;a#egi tezila, radal wa]un nu[da ine qazanila. dodingo kwana#egi hawun, ine]in wujaraw was hobolaS Tad wuSine hawunila. - duda hanib &ibgo fa$aib;i habi#e $ogo bi%izi&? - an hiqanila. - walah, duda bercin bi%arab gureyab, dida &ibgo fa$aibab $o bi%izo, - yan Zanila haw. - han$e dida {aduw waza, - yan co gwend bi%i#abunila haS hobolaSda. co ra]alde buTrul, cogi ra]alde qarqalabi ran rugila zwaral xafa#ul. - qwarifel hezeb $o `e{on wujarabani, mungi ha#da aSjow wujinaan. mun ~odoraw xi wi%ula, diCa duda kinabgo bicina. Гьагъай гIадан дир яццгIал йиго. Ниж гьитIинго рукIаго, хвана нижер эбел-эмен. Гьелълъул эбелалълъ холелълъул дида гьарана кIудияй гIезегIан гьелълъул тIалаб гьабейила, ваццги яццги гIадинги рукIайилан. КIудиял гIедалги, бокьани, дуего тейила, бокьичIони, абун вачIарассе кьейила. Абун чи вачIиндал, дицца гьелда гьикъана - «Мун гьессиейищ кьелей, диегойищ телей?» – ян. «Дуего те», – ян абуна гьелълъ. Диццаги гьедин гьабуна. havay fadan dir yaCfal yigo. ni$ hiTingo rujago, [wana ni$er ebel-emen. he:ul ebela: [ole:ul dida harana judiyay fe#efan he:ul Talab habeyila, waCgi yaCgi fadin rujayila. judiyal fedalgi, bopani, duyego teyila, bopizoni, abun wazaraSe peyila. abun xi wazindal, diCa helda hiqana - «mun heSiyeyi& peley, diyegoyi& teley?» - yan. «duyego te», - yan abuna he:. diCagi hedin habuna. Дун кьижун ккаравго, гьей къватIие уней йикIун йиго. Щаклъун цо сордоялълъ ххадуб ххал ккуна. Росу рагIалда бугеб цо рокъое тIерхьун гьейги ана, ххадувго дунги вилълъана. dun pi$un Karawgo, hey qwaTiye uney yijun yigo. &ak;un co sordoya: {adub {al Kuna. rosu rafalda bugeb co roqoye Ter%un heygi ana, {aduwgo dungi wi:ana. Дицца нуцIцIа ричIеян ахIана. РичIизе рахараб гурилан ахIана жаниссан. Бараб малалълъ нуцIцIаги речIчIизабун, дун жаниве кIанцIана. Жанив вукIарав дида тIад речIчIана. Гьессдасса дун къолев вукIана. Дицца гьелда гьарана дие дагьаб кумек гьабеян. Гьелълъни гьабичIо. Дида ххадуб бачIун букIун буго гьаб гьой. РечIчIун тIадгун, гьелълъ гьев тIутIун вана. Гьеб къоялдасса нахъе дицца гьей раххссида бана, гьелълъул бакIалда гьой рокъобеги бачана. ЯццгIал йикIун, чIвазеги кIвечIо, – ян лIугIизабунила гьесс жиндирго ххабар. diCa nu~a rizeyan a\ana. rizi#e ra[arab gurilan a\ana $aniSan. barab mala: nu~agi reZi#abun, dun $aniwe jan`ana. $aniw wujaraw dida Tad reZana. heSdaSa dun qolew wujana. diCa helda harana diye dahab kumek habeyan. he:ni habizo. dida {adub bazun bujun bugo hab hoy. reZun Tadgun, he: hew TuTun wana. heb qoyaldaSa na]e diCa hey ra{Sida bana, he:ul bajalda hoy roqobe baxana. yaCfal yijun, zwa#egi jwezo, - yan /ufi#abunila heS $indirgo {abar. Вас нухда вахъанила. Дол цадахъ рукIарал базаргаби, хъачагъалги тIаде кIанцIун, кодосса къайиги бахъун, ратанила. Щванила гьав жиндирго росулIе. Рукъалълъул кIалтIеги ун, гордухъан жаниве валагьанила. Дой гьассул чIчIужуги йигила гIодой йикIун. Гьелълъул накабазда бетIерги лъун, кьижун цо гIолохъанчиги вугила, гьессул бетIер лълъухьулей гьейги йигила. was nu[da wa]anila. dol cada] rujaral ba#argabi, ]axavalgi Tade jan`un, kodoSa qayigi ba]un, ratanila. &wanila haw $indirgo rosu/e. ruqa:ul jalTegi un, gordu]an $aniwe walahanila. doy haSul Zu$ugi yigila fodoy yijun. he:ul nakaba#da beTergi ;un, pi$un co folo]anxigi wugila, heSul beTer :u%uley heygi yigila. Цин ххиял гьабунила, бахъун хханжаргун, жаниве кIанцIизе, нахъеги ургъанила, базарганассул гIакълу гIадахъ босиялълъ гьанжелъагIанги мекъи ккечIин, гьаб нухалълъги, гIакълу ццебе, ццин нахъе ккезабун лълъикIилан кканила. Гьав эбелалълъухъе вилълъанила. Гьобол вокьиларищан, жаниве лIугьанила. Валлагь, вокьилинхха, нусго вугонигиян, херай разиго данде яхъанила. cin {iyal habunila, ba]un {an$argun, $aniwe jan`i#e, na]egi urvanila, ba#arganaSul faqlu fada] bosiya: han$e;afangi meqi Kezin, hab nu[a:gi, faqlu Cebe, Cin na]e Ke#abun :ijanilan Kanila. haw ebela:u]e wi:anila. hobol wopilari&an, $aniwe /uhanila. walah, wopilin{a, nusgo wugonigiyan, [eray ra#igo dande ya]anila. Квана-гьекъон вахъаравго, гьав цIеххолданила, дур лъимал-чагIиго гьечIищин, нахъе щал ругелилан. Гьалълъги ккараб жо бицанила, васги вукIанин жиндир. Цо пайда гьечIеб кIалъай жиндирги нусалълъулги ккунилан, къватIиве арав гьевги тIокIав тIад вуссинчIила. ГIемер мехх иналде нусалълъ месед гIадав васги гьавунила. Гьанже гьез тIалаб-агъазги гьабун, жийги йигила, васассулги щибго ххабар лъачIила. kwana-heqon wa]arawgo, haw `e{oldanila, dur ;imal-xafigo hezi&an, na]e &al rugelilan. ha:gi Karab $o bicanila, wasgi wujanin $indir. co _ayda hezeb ja;ay $indirgi nusa:ulgi Kunilan, qwaTiwe araw hewgi Tojaw Tad wuSinzila. femer me{ inalde nusa: mesed fadaw wasgi hawunila. han$e he# Talab-ava#gi habun, $iygi yigila, wasaSulgi &ibgo {abar ;azila. Гьеле гьев вас жив вугилан, эбелалда гьавги ххурхханила. Гьеб меххалдасса нахъе эбелги, васги, хъизанги цадахъ талихIаб гIумруялда ругила. hele hew was $iw wugilan, ebelalda hawgi {ur{anila. heb me{aldaSa na]e ebelgi, wasgi, ]i#angi cada] tali\ab fumruyalda rugila. 284. ГIакълу цIцIикIкIарассул гIамал гьитIинаб. faqlu ~iJaraSul famal hiTinab. 285. ГIакълу цIцIикIкIарассул нигат бацIцIадаб. faqlu ~iJaraSul nigat ba~adab. 286. ГIакълуги пагьмуги хIуруцца баххчулареб. faqlugi _ahmugi \uruCa ba{xulareb. 287. ГIакълуялда къуват бащалъулеб жо гьечIебила. faqluyalda quwat ba&a;uleb $o hezebila. 288. ГIакълуялълъул бетIергьан хIасад гьечIеб вукIуна. faqluya:ul beTerhan \asad hezeb wujuna. 289. ГIакълуялълъул эбел – калам дагь гьаби, дарабазул эбел – квен дагь гьаби. faqluya:ul ebel - kalam dah habi, daraba#ul ebel - kwen dah habi. 290. ГIакъуба бихьичIесс къо хIехьолареб. faquba bi%izeS qo \e%olareb. 291. ГIала бекерун цIцIар босиларо, цIцIуяй гьаюдун рукъ бечелъиларо. fala bekerun ~ar bosilaro, ~uyay hayudun ruq bexe;ilaro. 292. ГIала – чармил, чу – маххул. fala - xarmil, xu - ma{ul. 293. ГIалимчи гIалимчияссда лъала, гIакъил гIакъилассда лъала, гIарцул бацIцIалъи къебедассда лъала. falimxi falimxiyaSda ;ala, faqil faqilaSda ;ala, farcul ba~a;i qebedaSda ;ala. 294. ГIалимзабазда асскIов – жагьилчи, жагьилзабазда асскIов – гIалимчи. falim#aba#da aSjow - $ahilxi, $ahil#aba#da aSjow - falimxi. 295. ГIалимчи вукIине кколев гьулчун бачIунеб ралъад гIадавги щун бачIунеб гIор гIадавги. falimxi wujine Kolew hulxun bazuneb ra;ad fadawgi &un bazuneb for fadawgi. 296. ГIалимчи лъалев живго гIадав гIалимчияссда, устар лъалев живго гIадав устарассда. falimxi ;alew $iwgo fadaw falimxiyaSda, ustar ;alew $iwgo fadaw ustaraSda. 297. ГIалимчиги вукIунев, цо-цо цIцIалунчиги вукIунев. falimxigi wujunew, co-co ~alunxigi wujunew. 298. ГIалихъиличил хъиртIеги ине бегьула яс гьаризе, Хъарагищил гьинтIеги ине бегьула. fali]ilixil ]irTegi ine behula yas hari#e, ]aragi&il hinTegi ine behula. 299. ГIалххуда мокъокъги къороллъугеги, мокъокъил тIанчIиги бессдаллъугеги. fal{uda moqoqgi qorol;ugegi, moqoqil Tanzigi beSdal;ugegi. 300. ГIалххудаги берал ругел, къададаги гIундул ругел. fal{udagi beral rugel, qadadagi fundul rugel. 301. ГIалххул чанги цIунулеб жибго жинццаго, гIонкIкIол тIинчIги цIунулеб жибго жинццаго. fal{ul xangi `unuleb $ibgo $inCago, fonJol Tinzgi `unuleb $ibgo $inCago. 302. ГIамал бихьун хIалтIе, хIал бихьун хьвагIе. famal bi%un \alTe, \al bi%un %wafe. 303. ГIамал гьечIев гIалимчи – бакъ гьечIеб рагIад. famal hezew falimxi - baq hezeb rafad. 304. ГIамал зобгIан кIудияссда гIакълу заргIан гурони букIунаребила. famal #obfan judiyaSda faqlu #arfan guroni bujunarebila. 305. ГIамал къадаразе гьабураб лълъикIлъи – дуйго квешлъиялълъе батулеб бакIлъи. famal qadara#e haburab :ij;i - duygo kwe^;iya:e batuleb baj;i. 306. ГIамал кIудияв, гьунар гьитIинав. famal judiyaw, hunar hiTinaw. 307. ГIамал кIудияв чи – гIадамазул тушман, лIар бегIераб хIайван – хIайваназул тушман. famal judiyaw xi - fadama#ul tu^man, /ar beferab \aywan - \aywana#ul tu^man. 308. ГIамал кIудияссул гIакълу гьитIинаб. famal judiyaSul faqlu hiTinab. 309. ГIамал лълъикIаб чода нахъа-ццере рекIунел. famal :ijab xoda na]a-Cere rejunel. 310. ГIамал рекъечIеб ригьиналдассаги цIунаги, цIуна-къай гьечIеб хъизаналдассаги цIунаги. famal reqezeb rihinaldaSagi `unagi, `una-qay hezeb ]i#analdaSagi `unagi. 311. ГIамал рекъонила къадарги хъвалеб. famal reqonila qadargi ]waleb. 312. ГIамал рекъолареб къадаралдасса, къадарги щун хабалIе инго лълъикI. famal reqolareb qadaraldaSa, qadargi &un [aba/e ingo :ij. 313. ГIамалалда рекъарабила гIумруги букIунеб. famalalda reqarabila fumrugi bujuneb. 314. ГIамалалълъ басра гьавурав асс-къоялълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw aS-qoya: jodo hawularew. 315. ГIамалалълъ басра гьавурав насибалълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw nasiba: jodo hawularew. 316. ГIамаликъаб цIцIуяб жоялдассаги цIунаги, цIцIад гьечIеб рииялдассаги цIунаги. famaliqab ~uyab $oyaldaSagi `unagi, ~ad hezeb riiyaldaSagi `unagi. 317. ГIанабазда гIи хьихьуларо, гъалазда чу бухьунаро. fanaba#da fi %i%ularo, vala#da xu bu%unaro. 318. ГIанкIкI гьойдасса хIинкъарабила, гьой гIанкIкIидасса хIинкъарабила. fanJ hoydaSa \inqarabila, hoy fanJidaSa \inqarabila. 319. ГIанкIкI кколареб жоялълъ цер кквеларо. fanJ Kolareb $oya: cer Kwelaro. 320. ГIанкIкI чIвазе унелълъул, бацI чIвазе гIадин айила. fanJ zwa#e une:ul, ba` zwa#e fadin ayila. 321. ГIанкIкIгун вагъизе, гъалбацIгун вагъизе гIадин къачIай. fanJgun wavi#e, valba`gun wavi#e fadin qazay. 322. ГIанкIкIида гIарада речIчIулареб, чIчIотIоде ххвалчен хьвагIулареб. fanJida farada reZulareb, ZoTode {walxen %wafulareb. 323. ГIанкIкIил бихьинлъи-цIцIулъи хханассда гурони лъаларебила. fanJil bi%in;i-~u;i {anaSda guroni ;alarebila. Гьалълъул магIна гуро ххан гIакъилав вугилан, ялъуни гьессул лъай цIцIикIкIараб бугилан абураб. МагIна буго, гьесс бихьинабан абураб бихьинабан тезе ккола, цIцIуябан абураб цIцIуябан тезе ккола, гьессие бокьаралда ххадур рилълъинчIого чара гьечIоян абураб. ХIакъикъаталда ххалкъалълъ жидедаго гьоркьов ххан маххссара-ххочIалълъе гьавулев вуго. ha:ul mafna guro {an faqilaw wugilan, ya;uni heSul ;ay ~iJarab bugilan aburab. mafna bugo, heS bi%inaban aburab bi%inaban te#e Kola, ~uyaban aburab ~uyaban te#e Kola, heSiye boparalda {adur ri:inzogo xara hezoyan aburab. \aqiqatalda {alqa: $idedago horpow {an ma{Sara-{oza:e hawulew wugo. 324. ГIанкIкIие хIетI кьалаб, мокъокъие кIал кьалаб. fanJiye \eT palab, moqoqiye jal palab. 325. ГIанкIкIицца чIвараб цIцIум, цIцIецца ккураб бацI. fanJiCa zwarab ~um, ~eCa Kurab ba`. 326. ГIанкIкIиццаги беццулеб жиндирго рукIун, гIонкIкIоццаги беццулеб жиндирго каратI. fanJiCagi beCuleb $indirgo rujun, fonJoCagi beCuleb $indirgo karaT. 327. ГIанкIу бикъарасс оцги бикъулебила. fanju biqaraS ocgi biqulebila. 328. ГIанкIу кинаб бугониги, хханил тIагIам цо букIунеб. fanju kinab bugonigi, {amil Tafam co bujuneb. 329. ГIанкIу къинлъулареб хоно гъоркь течIони, хIалтIуде гъира балареб рахъи гьечIони. fanju qin;ulareb [ono vorp tezoni, \alTude vira balareb ra]i hezoni. 330. ГIанкIу холеб хъирщадулаго, гIадан холев бечелъизе чIучIадулаго. fanju [oleb ]ir&adulago, fadan [olew bexe;i#e zuzadulago. 331. ГIанкIу чIчIегIераб бугониги, хоно хъахIаб гьабула. fanju Zeferab bugonigi, [ono ]a\ab habula. 332. ГIанкIудал мокъида мокъокъ чIчIоларо, хIамил руссуналда чу бухьунаро. fanjudal moqida moqoq Zolaro, \amil ruSunalda xu bu%unaro. 333. ГIанкIудал ханазул тIамуниги лал бокъунарев. fanjudal [ana#ul Tamunigi lal boqunarew. 334. ГIанкIуялълъ квегъулеб хIелеко. fanjuya: kwevuleb \eleko. 335. ГIанкIуялълъ хъирщи таниги, чиясс ругьунаб гIамал толареб. fanjuya: ]ir&i tanigi, xiyaS ruhunab famal tolareb. 336. ГIантаб рагIи тIад буссун дудаго речIчIулеб. fantab rafi Tad buSun dudago reZuleb. 337. ГIантаб суалалълъе жавабги гIантаб букIуна. fantab suala:e $awabgi fantab bujuna. 338. ГIантаб томеналдасса цIцIодораб шагьи лълъикIаб. fantab tomenaldaSa ~odorab ^ahi :ijab. 339. ГIантав бахIарчияссдасса хIинкъарав цIцIодор лълъикIав. fantaw ba\arxiyaSdaSa \inqaraw ~odor :ijaw. 340. ГIантав вукIа абе, гIадалав вукIа абе – цого жо. fantaw wuja abe, fadalaw wuja abe - cogo $o. 341. ГIантав гьудулассдасса цIцIодорав тушманго лълъикIавила. fantaw hudulaSdaSa ~odoraw tu^mango :ijila. 342. ГIантал чагIи гьечIони, гIакъилассе боцIцIи кисса щвелеб? fantal xafi hezoni, faqilaSe bo~i kiSa &weleb? 343. ГIантасс лълъади какулейила, квешасс гьудул какулевила. fantaS :adi kakuleyila, kwe^aS hudul kakulewila. 344. ГIантассда цIеххезе кколареб, цIеххечIониги гьесс жинццаго бицунеб. fantaSda `e{e#e Kolareb, `e{ezonigi heS $inCago bicuneb. 345. ГIантассе – бухъарабго хоб, чIварабго лахIту. fantaSe - bu]arabgo [ob, zwarabgo la\tu. 346. ГIантассе кици тIамуни, гьелълъул магIнаги бицине кколебила. fantaSe kici Tamuni, he:ul mafnagi bicine Kolebila. 347. ГIаракъи – ургьибе, гIакълу – гьаваялде. faraqi - urhibe, faqlu - hawayalde. 348. ГIаракъидул шишаялълъ борлIулареб къед гьечIебила. faraqidul ^i^aya: bor/ulareb qed hezebila. 349. ГIарахъмагIардаги ссверун ралагье (ссверухъе ралагьичIого, рагIи кьвагьун биччаге). fara]mafardagi Swerun ralahe (Sweru]e ralahizogo, rafi pwahun biXage). 350. ГIарац балагьизе бигьаяб, кквезе захIматаб жойила. farac balahi#e bihayab, Kwe#e #a\matab #oyila. 351. ГIарац бекьани, месед бижулеб. farac bepani, mesed bi$uleb. 352. ГIарац бугев гуревила бечедав, гIакълу бугевила. farac bugew gurewila bexedaw, faqlu bugewila. 353. ГIарац бугессул рилълъингицин батIияб. farac bugeSul ri:ingicin baTiyab. 354. ГIарац бугони, магIардаги ах гьабула. farac bugoni, mafardagi a[ habula. 355. ГIарац гьечIессе буххча ссундуе, нич гьечIессе ххабар ссундуе? farac hezeSe bu{xa Sunduye, nix hezeSe {abar Sunduye? 356. ГIарац гьечIев чияссул чвантил кIалтIу къваридаб. farac hezew xiyaSul xwantil jalTu qwaridab. 357. ГIарац гьечIолъи – гIагарал чагIи гьечIолъи. farac hezoni - fagaral xafi hezoni. 358. ГIарац гIемерлъиялдасса гьудулзаби гIемерлъи лълъикIаб. farac femer;iyaldaSa hudul#abi femer;i :ijab. 359. ГIарац дагьаб бугониги гIола, гIемерлъанищ, гьелълъие гIей гьечIеб. farac dahab bugonigi fola, femer;ani&, he:iye fey hezeb. 360. ГIарац жо гуро, живго чи вукIине ккола. farac $o guro, $iwgo xi wujine Kola. 361. ГIарац кьавуцца кварав (ГIарцуда кьаву чIварав). farac pawuCa kwaraw (farcuda pawu zwaraw). 362. ГIарац кьун босараб жойилан, жугьтIицца ссапун кварабила. farac pun bosarab $oyilan, $uhTiCa Sa_un kwarabila. 363. ГIарац кIалъалеб меххалълъ, ритIухълъи буцIцIун чIчIола. farac ja;aleb me{a:, riTu];i bu~un Zola. 364. ГIарац рикIкIун босе, ххам борцун босе. farac riJun bose, {am borcun bose. 365. ГIарац тIагIинабизеги, чу хIалакъ гьабизеги – бигьаяб жо. farac Tafinabi#egi, xu \alaq habi#egi - bihayab $o. 366. ГIарац хъирис буго, букаричIого букIунаро. farac ]iris bugo, bukarizogo bujunaro. 367. ГIарац-меседалълъул багьа гьабизе бегьула, лълъикIаб рагIул багьа гьабун бажаруларо. farac-meseda:ul baha habi#e behula, :ijab raful baha habun ba$arularo. 368. ГIаркьел бекунилан, гъветI бакъвалареб. farpel bekunilan, vweT baqwalareb. 369. ГIарцул горал раниги, гуржи ганжалъиларо, горал рахъун лъуниги, хъирмил багьа хвеларо. farcul goral ranigi, gur$i gan$a;ilaro, goral ra]un ;unigi, ]irmil baha [welaro. 370. ГIарцул гьудуллъиги гьудуллъи гуребила, боцIцIул ригьинги ригьин гуребила. farcul hudul;igi hudul;i gurebila, bo~ul rihingi rihin gurebila. 371. ГIарцул квешлъи – гьечIолъи, гьанал квешлъи – хIалакълъи. farcul kwe^;i - hezo;i, hanal kwe^;i - \alaq;i. 372. ГIарцул кисаялдасса кIудияв чияссул гIакълу лълъикIаб. farcul kisayaldaSa judiyaw xiyaSul faqlu :ijab. 373. ГIарцул ссахIалдасса кIудияв чияссул гIакълу бергьунебила. farcul Sa\aldaSa judiyaw xiyaSul faqlu berhunebila. 374. ГIарцуцца бацIцIуна, боцIцIуцца чурула. farcuCa ba~una, bo~uCa xurula. 375. ГIарцуцца хханассул лагъги лагъассул хханги гьавулев. farcuCa {anaSul lav;i lavaSul {angi hawulew. 376. ГIатI бугони – ххинкIал, ххам бугони – ретIел. faT bugoni - {injal, {am bugoni - reTel. 377. ГIатI лълъамалъи – чохьол талихI. faT :ama;i - xo%ol tali\. 378. ГIатIада хIучч хъвалев, ххинкIазда гIуж балев. faTada \uX ]walew, {inja#da fu$ balew. 379. ГIатIалълъ лъурай гIунарай, гIазулI лъурай йорчIарай (гIуничIей). faTa: ;uray funaray, fa#u/ ;uray yorzaray (funizey). ХIинкьи букIун, эбелалълъ жиндирго яс гIатIалълъ яххчун йиго, бессдал яс, квачангIаги хвелародаян, гIазулI къазаюн йиго... \inqi bujun, ebela: $indirgo yas faTa: ya{xun yigo, beSdal yas, kwaxanfagi [welarodayan, fa#u/ qa#ayun yigo... 380. ГIатIго букIаго, кьуризе дидаги лъачIо, бакъвадго кьурулаго, къваркьан бекана (Хьопода кьуричIони, гIоркьида бекулеб). faTgo bujago, puri#e didago ;azo, baqwadgo purulago, qwarpan bekana (%o_oda purizoni, forpida bekuleb). 381. ГIатIго цIцIачIеб ботIил чIор, бучIулI цIцIани, бекула, борчIулI квер щвечIеб кеке хIасралъуда ххутIула. faTgo ~azeb boTil zor, buzu/ ~ani, bekula, borzu/ kwer &wezeb keke \asra;uda {uTula. 382. ГIатIиги тIатIиги – цого жо. faTigi TaTigi - cogo $o. 385. ГIатIидаб дунялалда кьечIеб талихI къваридаб хобалълъубги кьеларо. faTidab dunyalalda pezeb tali\ qwaridab [oba:ubgi pelaro. 386. ГIатIидал къоял ххеххго къокъунел, къваридал ун рахъунарел. faTidal qoyal {e{go qoqunel, qwaridal un ra]unarel. 387. ГIатIидассе кьурул нохъоги гIатIидаб, къваридассе тIолго дуниялги къваридаб. faTidaSe purul no]ogi faTidab, qwaridaSe Tolgo duniyalgi qwaridab. 388. ГIатIилъиялде ккани, къварилъи кIочон толеб. faTi;iyalde Kani, qwari;i joxon toleb. 389. ГIахьалаб гьойдасса нилIго бетIергьанаб кетого лълъикIила. fa%alab hoydaSa ni/go beTerhanab ketogo :ijila. 390. ГIачигъовулI вищарав, бакъанида реххарав (рехьед биххулI реххарав). faxivowu/ wi&araw, baqanida re{araw (re%ed bi{u/ re{araw). 391. ГIачиялълъе чу гъурай, чахъабалълъе росс гъурай. faxiya:e xu vuray, xa]aba:e roS vuray. 392. ГIачIрал гьаналги гьагIуйила, бачил гьаналги гьагIуйила. fazral hanalgi hafuyila, baxil hanalgi hafuyila. 393. ГIашилтIа Манташ гIадин. fa^ilTa manta^ fadin. Манташ вукIун вуго бечедав инссул вас, гьагав гIоркьилав. ГIолохъанлъиялде вахаралдасса нахъего тIеренаб дарайдул гвердилI реххулел рукIун руго Манташицца ххасалил кьварарал къоял. «Ххасало гвала ретIе, Манташ, риидал гвердилI вукIа!» – ян гIадамаз гIакълу кьураб меххалълъ, гьесс абулеб букIун буго ххасалил лъабго моцIцIалълъе гIоло Манташицца чIухIи гIодобе реххуларилан. Гьеб чIухIиялълъ Манташ нуха регIун вуго кIикъого соналълъул гIумруялде вахиналдего. manta^ wujun wugo bexedaw inSul was, hagaw forpilaw. folo]an;iyalde wa[araldaSa na]ego Terenab daraydul gwerdi/ re{ulel rujun rugo manta^iCa {asalil pwararal qoyal. «{asalo gwala reTe, manta^, riidal gwerdi/ wuja!» - yan fadama# faqlu purab me{a:, heS abuleb bujun bugo {asalil ;abgo mo~a:e folo manta^iCa zu\i fodobe re{ularilan. heb zu\iya: manta^ nu[a refun wugo joqogo sona:ul fumruyalde wa[inalde. Гьаб буго гIемерал магIарулазда гьоркьоб тIибитIун араб дандекквеялълъулаб кици. Кин, щиб хIалалда вугеван гьикъараб меххалълъ, тIассан борчIараб эркенлъиялда вугилан абураб магIнаялда, цо-цояз жаваб кьола ГIашилтIа Манташ гIадин вугилан. hab bugo femeral mafarula#da horpob TibiTun arab dandeKweya:ulab kici. kin, &ib \alalda wugewan hiqarab me{a:, TaSan borzarab erken;iyalda wugilan aburab mafnayalde, co-coya# $awab pola fa^ilTa manta^ fadin wugilan. 394. ГIащтIи хвезе ноцIцI гIадав, цIцIам гьечIеб чурпа гIадав. fa&Ti [we#e no~ fadaw, ~am hezeb xur_a fadaw. 395. ГIашура къваридаб, къурбан гIатIидаб. fa^ura qwaridab, qurban faTidab. 396. ГIашурадул моцIцIилан абула моцIцIрол соналълъул мухIарам моцIцIалде, къурбанаб моцIцIиланги абула зулхIижат моцIцIалде. Гьеб кIиябго моцIцIалда жаниб кколеб хис-басалълъул хIакъалълъулI буго кици. «МухIарам моцIцI кьерхадул, зулхIижат моцIцI роцIцIадул» абураб магIнаялдаги хIалтIизабула. fa^uradul mo~ilan abula mo~rol sona:ul mu\aram mo~olde, qurbanab mo~ilangi abula #ul\i$at mo~alde. heb jiyabgo mo~alda $anib Koleb [is-basa:ul \aqa:u/ bugi kici. «mu\aram mo~ per[adul, #ul\i$at mo~ ro~adul» aburab mafnayaldagi \alTi#abula. 397. ГIебуда зар баге, зазида хIетIе чIчIоге. febuda #ar bage, #a#ida \eTe Zoge. 398. ГIебуялдасса бегIераб жо – гIолохъанчияссул ракI, моххмоххидасса кьарияб жо – мегIер. febuyaldaSa beferab $o - folo]anxiyaSul raj, mo{mo{idaSa pariyab $o - mefer. 399. ГIебуялълъ гIебу борлIулареб. febuya: febu bor/ulareb. 400. ГIедал течIони, хведал толебила. fedal tezoni, [wedal tolebila. 401. ГIедал щарги чIвалеб, ккедал (щведал) чиги чIвалев. fedal &argi zwaleb, Kedal (&wedal) xigi zwalew. Ццебе, чабхъадул заманалда, Мусал ГIадалаван вукIун вуго цIцIар рагIарав ццевехъан. Чабхъад живги вачеян гьаризе арав цо гIолохъанчияссда гьев ватун вуго щар чIвалев. Cebe, xab]adul #amanalda, musal fadalawan wujun wugo ~ar rafaraw Cewe]an. xab]ad $iwgi waxeyan hari#e araw co folo]anxiyaSda hew watun wugo &ar zwalew. Дуцца, цIцIар рагIарав бахIарчиясс, щаргIаги щай чIвалебан гьикъараб меххалълъ, гьесс жаваб кьун буго. БахIарчи эбалълъе ясги вукIине кколев, ясалълъе россги вукIине кколев. ГIедал щарги чIвалеб нилIецца, ккедал чиги чIвалев нилIецца. duCa, ~ar rafaraw ba\arxiyaS, &arfagi &ay zwaleban hiqarab me{a:, heS $awab pun bugo. ba\arxi ebela:e yasgi wujine Kolew, yasa:e riSgi wujine Kolew. fedal &argi zwaleb ni/eCa, Kedal xigi zwalew ni/eCa. 402. ГIедал яс раса-цIцIалкIугун ягъулей. fedal yas rasa-~aljugun yavuley. 403. ГIедал яс россассе кье, яс йиго цIцIорол цIарагI. fedal yas roSaSe pe, yas yigo ~orol `araf. 404. ГIедал ясалълъе росс щваги, бокъиндал лалие гьури бачIаги. fedal yasa:e roS &wagi, boqindal laliye huri bazagi. 405. ГIедегIараб гважуцца беццаб когIо гьабулебила. fedefarab gwa$uCa beCab kofo habulebila. 406. ГIедегIараб гIанкIкI гьакицца кколеб. fedefarab fanJ hakiCa Koleb. 407. ГIедегIараб гIор ралъдахъе щолареб. fedefarab for ra;da]e &olareb. 408. ГIедегIун вачIарав гьобол гIедегIун уневила. fedefun wazaraw hobol fedefun unewila. 409. ГIедегIун гьабурабгIан, мурадалде щоларел. fedefun haburabfan, muradalde &olarel. 410. ГIедегIун хверхараб ххеххго биххулеб. fedefun [we[arab {e{go bi{uleb 411. ГIедегIунги гьабуге, гIададаги вукIунге. fedefungi habuge, fadadagi wujunge. 412. ГIей гьечIеб боцIцIиялдасса цIунаги. fey hezeb bo~iyaldaSa `unagi. 413. ГIейдал течIони, хвейдал толебила. feydal tezoni, [weydal tolebila. 414. ГIелалдего херлъарав, хвелалдего шапарав. felaldego [er;araw, [welaldego ^a_araw. 415. ГIелалълъ гIел ккола, кьералълъ кьер ккола. fela: fel Kola, pera: per Kola. 416. ГIелму асслу буго, пагьму кьучIчI буго, кьучIчIалда гурони къедги чIчIоларо. felmu aSlu bugo, _ahmu puZ bugo, puZalda guroni qedgi Zolaro. 417. ГIелму бигьаяб жояни, гIундулххалатиццаги гьабилаан. felmu bihayab $oyani, fundul{alatiCagi habilaan. 418. ГIелму бикъуларо, гIакълу бахъуларо. felmu biqularo, faqlu ba]ularo. 419. ГIелму бокьарассда макьу щоларо. felmu boparaSda mapu &olaro. 420. ГIелму бугев гIабдалги вукIунев, гIакълу бугев жагьилги ватулев. felmu bugew fabdalgi wujunew, faqlu bugew $ahilgi watulew. 421. ГIелму – гъветI, гIамал – пихъ. felmu - vweT, famal - _i]. 422. ГIелму гьечIеб ххалгIаталълъги лъай гьечIеб бетIералълъги чи алжаналълъуве вачинаро. felmu hezeb {alfata:gi ;ay hezeb beTera:gi xi al$ana:uwe waxinaro. 423. ГIелму гьечIев – рекъав, гIакълу гьечIев – беццав. felmu hezew - reqaw, faqlu hezew - beCaw. 424. ГIелму – гIакълуялълъул черхх. felmu - faqluya:ul xer{. 425. ГIелму гIодоб батулареб, гIакълу бичун босулареб. felmu fodob batulareb, faqlu bixun bosulareb. 426. ГIелму дагьав гIалимчи росугун къаццандула. felmu dahaw falimxi rosugun qaCandula. 427. ГIелму жавгьар буго, жагьлу загьру буго. felmu $awhar bugo, $ahlu #ahru bugo. 428. ГIелму – канлъи, жагьлу – бецIцIлъи. felmu - kan;i, $ahlu - be~;i. 429. ГIелму къарзалълъе кьолареб. felmu qar#a:e polareb. 430. ГIелму тIалаб гьабейила, киниялдассан байбихьун, лахIтуялде щвезегIан. felmu Talab habeyila, kiniyaldaSan baybi%un, la\tuyalde &we#efan. 431. ГIелму цIцIали – бигьаяб жо, гIадан лIугьин – захIматаб жо. felmu ~ali - bihayab $o, fadan /uhin - #a\matab $o. 432. ГIелмудал лълъалъ щвараб лъайги камилаб. felmudal :a; &warab ;aygi kamilab. 433. ГIакълудал нур гIураб гIадлуги лълъикIаб. faqludal nur furab fadlugi :ijab. 434. ГIелмуялдасса бергьараб жо – гIакълу. felmuyaldaSa berharab $o - faqlu. 435. ГIелмуялълъ гIакълу кьола, гIакълуялълъ пайда кьола. felmuya: faqlu pola, faqluya: _ayda pola. 436. ГIелмуялълъ гIодовегIанав чи тIадегIан гьавула, жагьиллъиялълъ тIадегIанав чи гIодовегIан гьавула. felmuya: fodowefanan xi Tadefan hawula, $ahil;iya: Tadefanaw xi fodowefan hawula. 437. ГIелмуялълъ лълъалъачIого, гIакълуялда тIегь балареб. felmuya: :a;azogo, faqluyalda Teh balareb. 438. ГIелмуялълъе къадаравгIан гIалимчияссул нух къваридаб. felmuya:e qadarawfan falimxiyaSul nu[ qwaridab. 439. ГIелмуялълъул бетIер – гIакълу, гIакълуялълъул бетIер – ссабру, ссабруялълъул бетIер – пикру. felmuya:ul beTer - faqlu, faqluya:ul beTer - Sabru, Sabruya:ul beTer - _ikru. Цо гIолилав ун вукIаравила рикIкIадаб улкаялде цIцIализе. ЦIцIалун вачIунаго, щваравила цо херав чияссда асскIове. cu folilaw un wujarawila riJadab ulkayalde ~ali#e. ~alun wazunago, &warawila co [eraw xiyaSda aSjowe. Гьикъарабила херав чиясс. hiqarabila [eraw xiyaS. - ГIелму щварабищ, гьудул? - felmu &warabi&, hudul? - Щвана, цIцIалун вахъана. - &wana, ~alun wa]ana. - ГIелмуялълъул бетIер щибхха? felmuya:ul beTer &ib{a? - Лъаларо. - ;alaro. - Лъалареб батани, – ян абун буго херасс, – мун дагьавги цIцIализе ккелахха. - ;alareb batabi, - yan abun bugo [eraS, - mun dahawgi ~ali#e Kela{a. Нахъвуссун вуго. Гьанжесса жиндирго устарассдассан гьассда лъан буго гIелмуялълъул бетIер щибали. na]wuSun wugo. han$eSa $indirgo ustaraSdaSan haSda ;an bugo felmuya:ul beTer &ibali. ГIолилав гьанжеги вачIун вуго кIудияв чияссухъе. folilaw han$egi wazun wugo judiyaw xiyaSu]e. - Щиб ккараб? Лъарабищ гIелмуялълъул бетIер щибали? – ян гьикъун буго кIудияв чиясс. - &ib Karab? ;alabi& felmuya:ul beTer &ibali? - yan hiqun bugo judiyaw xiyaS. - ГIелмуялълъул бетIер гIакълу буго, – ян жаваб кьун буго гIолиласс. - felmuya:ul beTer faqlu bugo, - yan $awab pun bugo folilaS. - БитIун буго. Элълъулги бетIер щибхха? – ян гьикъун буго херасс. - biTun bugo. e:ulgi beTer &ib{a? - yan hiqun bugo [eraS. Лъаларилан жаваб кьун буго гIолиласс. ;alarilan $awab pun bugo folilaS. КIудияв чиясс гIолохъанчи нахъвуссинавун вуго. «ГIелмуялълъул бетIер гIакълу, гIакълуялълъул бетIер ссабру, ссабруялълъул бетIер пикру буго», – ян жаваб кьезегIан. judiyaw xiyaS folo]anxi na]wuSinawun wugo. «felmuya:ul beTer faqlu, faqluya:ul beTer Sabru, Sabruya:ul beTer _ikru bugo», - yan $awab pe#efan. 440. ГIемер бихьани, гIемер лъалеб, гIемер цIцIалани, дагьабги цIцIикIкIун лъалеб. femer bi%ani, femer ;aleb, femer ~alani, dahabgi ~iJun ;aleb. 441. ГIемер бицани цого жо чIалгIунеб, гIемер чIамуни ссакъисс бутIунеб. femer bicani cogo $o zalfuneb, femer zamuni SaqiS buTuneb. 442. ГIемер букIине ккани, гIемер хIалтIизеги кколев. femer bujine Kani, femer \alTi#egi Kolew. 443. ГIемер вачIани, гьобол чIалгIуна, гIемер чIамуни, ссакъисс бутIуна. femer wazani hobol zalfuna, femer zamuni SaqiS buTuna. 444. ГIемер велъани, велъаравгIан гIодизеги ккола. femer we;ani, we;arawfan fodi#egi Kola. 445. ГIемер гаргади гIарац батани, гаргадичIого чIчIей месед буго. femer fargadi farac batani, gargadizogo Zey mesed bugo. 446. ГIемер гаргадулел Аллагьассеги рокьуларел. femer gargadulel allahaSegi ropularel. 447. ГIемер гьеданищ – гьеб буго гьересси. femer hedani& - heb bugo hereSi. 448. ГIемер гьедарулесс гIемер гьерссал рицунел. femer hedaruleS femer herSal ricunel. 449. ГIемер гIодой къуларай балъго хъахIба ятула, кIал чалуххай чидар яс черхх цIунарай ятула. femer fodoy qularay ba;go ]a\ba yatula, jal xalu{ay xidar yas xer{ `unaray yatula. 450. ГIемер гIорцIцIизабуни катицца гIункIкI кколареб, цIакъго гогьдаризаруни лъималаз дунял гьабулареб. femer for~i#abuni katiCa funJ Kolareb, `aqgo gohdari#aruni ;imala# dunyal habulareb. 451. ГIемер жо лъанилан гIакъил вахъунарев. femer $o ;anilan faqil wa]unarew. 452. ГIемер кванани, гьоцIцIоги кьогIлъулеб. femer kwanani, ho~ogi pof;uleb. 453. ГIемер кванани кванил тIагIам хола, гIемер бицани рагIул магIна хола. femer kwanani kwanil Tafam [ola, femer bicani raful mafna [ola. 454. ГIемер кванани чехь унтулеб, гIемер гаргадани бетIер унтулеб. femer kwanani xe% untuleb, femer gargadani beTer untuleb. 455. ГIемер кванарассул квандасса хьул буссуна, гIемер гаргадулессдасса гIадамазул ракI буссуна. femer kwanaraSul kwandaSa %ul buSuna, femer gargaduleSdaSa fadama#ul raj buSuna. 456. ГIемер кванаялълъ кечI ахIиларо. femer kwanaya: kez a\ilaro. 457. ГIемер квер – кьарияб, цо квер – хIалакъаб. femer kwer - pariyab, co kwer - \alaqab. 458. ГIемер къвакъвадулеб къурщицца хоно гьабуларебила. femer qwaqwaduleb qur&iCa [ono habularebila. 459. ГIемер къвакъвадулелълъул ханал дагьал рукIуна. femer qwaqwadule:ul [anal dahal rujuna. 460. ГIемер кьвагьуге, ишан ккун кьвагье. femer pwahuge, i^an Kun pwahe. 461. ГIемер кIалъай гIарац батани, кIалъачIого чIчIей меседила. femer ja;ay farac batani, ja;azogo Zey mesedila. 462. ГIемер кIалъалессул хIалтIи дагьаб. femer ja;aleSul \alTi dahab. 463. ГIемер лълъадахъани, гIеретI бекула. femer :ada]ani, fereT bekula. 464. ГIемер лъай, дагь кIалъай. femer ;ay, dah ja;ay. 465. ГIемер лIухьун рукъ бацIцIалъулареб, рацIцIалъи цIунулеб гьечIони, гIемер чурун ретIел бацIцIалъулареб, бацIцIад цIунизе лъачIони. femer /u%un ruq ba~a;ulareb, ra~a;i `unuleb hezoni, femer xurun reTel ba~a;ulareb, ba~ad `uni#e ;azoni. 466. ГIемер мехх барассда гуребила лъалеб, гIемер бихьарассдайила. femer me{ baraSda gurebila ;aleb, femer bi%araSdayila. 467. ГIемер мехх барассда гIемераб лъалеб (дудасса цо къоялълъ кIудияссул цо къоялълъул гIакълу цIцIикIкIун букIунеб). femer me{ baraSda femerab ;aleb (dudaSa co qoya: judiyaSul co qoya:ul faqlu ~iJun bujuneb). 468. ГIемер мехх барассда гIемер лъала, дуниял бихьарассда дагьабги цIцIикIкIун лъала. femer me{ baraSda femer ;ala, duniyal bi%araSda dahabgi ~iJun ;ala. 469. ГIемер меххалълъ чIчIараб жоги – хIама, чIчIечIого вилълъаравги – гIабдал. femer me{a: Zarab $ogi - \ama, Zezogo wi:arawgi - fabdal. 470. ГIемер тIад тенкани, ганчIидаги гвенд лIугьуна. femer Tad tenkani, ganzidagi gwend /uhuna. 471. ГIемер чIчIейги цIцIар гуро, чIчIечIого вилълъинги рецц гуро. femer Zeygi ~ar guro, Zezogo wi:ingi reC guro. 472. ГIемераб беццараб роццаххун уна. femerab beCarab roCa{un una. 473. ГIемераб бокьарассе дагьабгицин щоларо. femerab boparaSe dahabgicin &olaro. 474. ГIемераб гIазу – гIемераб тIорщел. femerab fa#u - femerab Tor&el. 475. ГIемераб – гIорцIцIизегIан, дагьаб – тIагIинегIан. femerab - for~i#efan, dahab - Tafinefan. 476. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикIго лъай лълъикIабила. femerab $o kwe^go ;ayaldaSa conigi $o :ijgo ;ay :ijila. Цо къоялълъ хъаз къуркъбузул хIорихъе бачIун буго. Жидерго хIорде хъаз бачIин къуркъбузе рекIее гIун гьечIо. КIиялго къаццандизе, цоцазде рогьрал разе лIугьун руго. Хъаз чIухIун кIалъан буго - «Дида лълъедезеги лъала, ракъдассан билълъинеги лъала, гьаваялдассан боржинеги кIола…» co qoya: ]a# qurqbu#ul \ori]e bazun bugo. $idergo \orde ]a# bazin qurqbu#e rejeye fun hezo. jiyalgo qaCandi#e, coca#de rohral ra#e /uhun rugo. ]a# zu\un ja;an bugo - «dida :ede#egi ;ala, raqdaSan bi:inegi ;ala, hawayaldaSan bor$inegi jola...» Гьелълъ бицунебги гьоркьоб къотIизабун, цо къверкъалълъ гьелълъие жаваб кьун буго - «Дуда чан жо лъалеб батаниги, цонигияб рагIа-ракьанде щун лъаларо. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикI лъай лълъикIаб буго» he: bicunebgi horpob qoTi#abun, co qwerqa: he:iye $awab pun bugo - «duda xan $o ;aleb batanigi, conigiyab rafa-rapande &un ;alaro. femerab $o kwe^ ;ayaldaSa conigi $o :ij ;ay :ijab bugo» 477. ГIемераб зигардиялдасса дагьаб жигар лълъикIаб. femerab #igardiyaldaSa dahab $igar :ijab. 478. ГIемераб кванани, гьоцIцIоги загьрулъулебила. femerab kwanani, ho~ogi #ahru;ulebila. 479. ГIемераб рахIаталдасса рагIулареб хIалтIи лълъикIаб. femerab ra\ataldaSa rafulareb \alTu :ijab. 480. ГIемераб рокъоб лълъикIаб, рекъараб ургьиб лълъикIаб. femerab roqob :ijab, reqarab urhib :ijab. 481. ГIемераб цIцIад бани ххер лълъикI бижула, гIемер кIалъанани калам хола. femerab ~ad bani {er :ij bi$ula, femer ja;anani kalam [ola. 482. ГIемер бицардана – дагьаб бичIчIана. femer bicardana - dahab biZana. 483. ГIемерав бицардани, гIемерав мекъи ккола. femeraw bicardani, femeraw meqi Kola. 486. ГIемерав вегиялълъ габур гьетIарав, гIемерав кьижиялълъ рукьби унтарав. femeraw wegiya: gabur heTaraw, femeraw pi$iya: rupbi untaraw. 487. ГIемерал санал рарассда гуребила лъалеб, гIемераб бихьарассдайила. femeral sanal raraSda gurebila ;aleb, femerab bi%araSdayila. 488. ГIемерги гаргадуге, мунго гIантав гьечIолъиги лъазабичIогоги тоге. femergi gargaduge, mungo fantaw hezo;igi ;a#abizogogi toge. 489. ГIемерго бакъваги гьабуге, бакъалда балеб хIалалълъ лълъамаги гьабуге. femergo baqwagi habuge, baqalda baleb \ala: :amagi habuge. 490. ГIемерго веццулев вугони, гьелда нахъа бугеб гъвацилги хIисаб гьабейила. femergo weCulew wugoni, helda na]a bugeb vwacilgi \isab habeyila. 491. ГIемерго къвакъвадани, цо балагьалде ккола. femergo qwaqwadani, co balahalde Kola. 492. ГIемерго къвакIани, къвакIан бекула. femergo qwajani, qwajan bekula. 493. ГIемерго къваригIани, къатIраги щолареб. femergo qwarifani, qaTragi &olareb. 494. ГIемерго нечарав бихьинчиги лълъикIав вукIунарев, нич бахъарай чIчIужугIаданги лълъикIай йикIунарей. femergo nexaraw bi%inxigi :ijaw wujunarew, nix ba]aray Zu$ufadangi :ijay yijunarey. 495. ГIемерго пударун, бакъул ххинлъи хвезабуге. femergo _udari, baqul {in;i [we#abuge. 496. ГIемерго сихIирлъиги хIалихьалъийила. femergo si\ir;igi \ali%a;iyila. 497. ГIемерго ххиралъиялълъ катицца тIинчI кванарабила. femergo {ira;iya: katiCa Tinz kwanarabila. 498. ГIемерго хIалимлъиги хIалихьалъийила. femergo \alim;igi \ali%a;iyila. 499. ГIемериссеб балагь – мацIцIалълъул балагь. femeriSeb balah - ma~a:ul balah. 500. ГIемериссел мунагьал мацIцIалдалъун рукIунел. femeriSel munahal ma~alda;un rujunel. 501. ГIемерлъани меседилги къимат холебила. femer;ani mesedilgi qimat [olebila. 502. ГIенеккулезухъ балагьун бице, бицаралълъухъ балагьун борце. feneKule#u] balahun bice, bicara:u] balahun borce. 503. ГIенеккун чIчIейги жавабила. feneKun Zeygi $awabila. 504. ГIергIедулеб басиялълъ рохьдой хIалхьи толаро, кIалдисса хъачIав чиясс жамагIатги квегъула. ferfeduleb basiya: ro%doy \al%i tolaro, jaldiSa ]azaw xiyaS $amafatgi kwevula. 505. ГIерещмухIумил гьобо гIадин ссвакан бугила. fere&mu\umil hobo fadin Swakan bugila. 506. ГIетI баккичIеб бетIер батIаргьиналълъ къазе кколеб. feT baKizeb beTer baTarhina: qa#e Koleb. 507. ГIетI баккулел кверазда нах бахинчIого ххутIулареб. feT baKulel kwera#da na[ ba[inzogo {uTuleb. 508. ГIетIуцца ссвак бахъулеб, ссапнацца гъиз бахъулеб. feTuCa Swak ba]uleb, Sa_naCa vi# ba]uleb. 509. ГIечугъотIодасса цIулакьо чIвалареб. fexuvoTodaSa `ulapo zwalareb. 510. ГIеч квани – гага, гени квани – гIоркь. fex kwani - gaga, geni kwani - forp. 511. ГIечудасса Хважа гIадин вуссанила. fexudaSa [wa$a fadin wuSanila. 512. ГIи бугев чийилан, чияссе ратIа кьечIев, чанаве ун, чияда маза гьанал бихьичIев. fi bugew xiyilan, xiyaSe raTa pezew, xanawe un, xiyada ma#a hanal bi%izew. 513. ГIи бугони – чаландар, чу бугони – багьадур. fi bugoni - xalandar, xu bugoni - bahadur. 514. ГIи гьабилалде гIиял хьон гьабе (ГIиял хьон – ххер, ххарил хьон – беэнлъи). fi habilalde fiyal %on (fiyal %on - {er, {aril %on - been;i). 515. ГIи гьечIеб бечелъиги бечелъи гуро, тIеренаб хьвацIцIил чаранлъиги чаранлъи гуро. fi hezeb bexe;igi bexe;i guro, Terenab %wa~il xaran;igi xaran;i guro. 516. ГIи гьечIессул гьан дагьаб, хIама гьечIессул цIул дагьаб. fi hezeSul han dahab, \ama hezeSul `ul dahab. 517. ГIи кьаралъи – вехьассул гьунар, гIака кьаралъи – чIчIужуялълъул гьунар. fi para;i - we%aSul hunar, faka para;i - Zu$uya:ul hunar. 518. ГIи мискинасс хьихьулеб, гьан бечедасс кваналеб. fi miskinaS %i%uleb, han bexedaS kwanaleb. 519. ГIи тIуридалила гIангис тIурулеб (Радал гIи тIурулеб, гIангис къаденахъе тIурулеб). fi Turidalila fangis Turuleb (radal fi Turuleb, fangis qadena]e Turuleb). 520. ГIи хьихьичIесс хьолбол гьан кунареб. fi %i%izeS %olbol han kunareb. 521. ГIи цIунизе бацI тоге, яс цIунизе вас тоге. fi `uni#e ba` toge, yas `uni#e was toge. 522. ГIи цIунизе бацI тарав. fi `uni#e ba` taraw. 523. ГIи чохьоцца гъурула, базар гъараялълъ уна, на гьороцца босула, гьабал ихицца уна. Хур босе! Хур босе! (Гьидерил кици). fi xo%oCa vurula, ba#ar varaya: una, na horoCa bosula, habal i[iCa una. [ur bose! [ur bose! (hideril kici). 524. ГIибрат босун хIалтIарав хIалтIулI нахъа кколаро, гIумруялълъул нух лъарав нахъа пашманлъуларо. fibrat bosun \alTaraw \alTu/ na]a Kolaro, fumruya:ul nu[ ;araw na]a _a^man;ularo. 525. ГIигIлу – гIадамассул, къадар – Аллагьассул. fiflu - fadamaSul, qadar - allahaSul. 526. ГIила гьечIеб жо гьечIеб, гIайиб гьечIев чи гьечIев. fila hezeb $o hezeb, fayib hezew xi hezew. 527. ГIила гьечIого барщарав, мухь кьечIого рекъолевила. fila hezogo bar&araw, mu% pezogo reqolewila. 528. ГIила гьечIого гIемер велъулев чи – черххалълъул цо чIил камурав чи. fila hezogo femer we;ulew xi - xer{a:ul co zil kamuraw xi. 529. ГIин тIаме, битIаралда гурони божуге. fin Tame, biTaralda guroni bo$uge. 530. ГIин цIуне къваригIел гьечIеб рагIиялдасса, бер цIуне къваригIел гьечIеб жоялдасса (къваригIел гьечIеб рагIугеги, ссурукъаб бихьугеги). fin `une qwarifel hezeb rafiyaldaSa, ber `une qwarifel hezeb $oyaldaSa (qwarifel hezeb rafugegi, Suruqab bi%ugegi). 531. ГIиналдасса бер ццебессеб. finaldaSa ber CebeSeb. 532. ГIинкъав беццассда баххиллъулевила, беццав гIинкъассда баххиллъулевила. finqaw beCaSda ba{il;ulewila, beCaw finqaSda ba{il;ulewila. 533. ГIинкъав нечоларев, беццав хIинкъуларев. finqaw nexolarew, beCaw \inqularew. 534. ГIинкъав чияссе кIицIцIул как ахIулареб. finqaw xiyaSe ji~ul kak a\ulareb. 535. ГIинкъай бахIарай гIадин. finqay ba\aray fadin. БахIаралда рагIулеб букIун гьечIо асскIор ругез бицунеб жо. Гьелълъ асскIой йигей гьудулалада гьарун буго, цогидал релъулеб меххалълъ, жиндаги тункейилан. Гьудул, цо рахъалде юссунаго, бахIаралда дагьайго хъван йиго, бахIаралълъги гьабун буго цо кIудияб релъи. ba\aralda rafulareb bujun hezo aSjor ruge# bicuneb $o. he: aSjoy yigey hudulalda harun bugo, cogidal re;uleb me{a:, $indagi tunkeyila. hudul, co ra]alde yuSunago, ba\aralda dahaygo ]wan yigo, ba\ara:gi habun bugo co judiyab re;i. 536. ГIинкъаллъун жанире айила, беццаллъун къватIире лIугьайила. finqal;un $anire ayila, beCal;un qwaTire /uhayila. 537. ГIинкъассда вихьизе чIчIоге, беццассухъе кквезе чIчIоге. finqaSda wi%i#e Zoge, beCaSu]e Kwe#e Zoge. 538. ГIинкъассда щуруге, беццассде къинкIуге. finqaSda &uruge, beCaSde qinjuge. 539. ГIинтIи квараб меххалълъ буртIал гIадин. finTi kwarab me{a: burTal fadin. 540. ГIинтIи кварасс бакI-бакI хъассизе кколебила, ургъичIого кIалъарасс бакI-бакIги бетIерги хъассизе кколебила. finTi kwaraS baj-baj ]aSi#e Kolebila, urvizigo ja;araS baj-bajgi beTergi ]aSi#e Kolebila. 541. ГIинтIизе ццевеги кIанцIуге, речIчIизе нахъаги чIчIоге. finTi#e Cewegi jan`uge, reZi#e na]agi Zoge. 542. ГIисси-бикъинал накIкIал бакъуцца кунел, дагьа-макъаб унти кваницца унеб. fiSi-biqinal naJal baquCa kunel, daha-maqab unti kwaniCa uneb. 543. ГIиссинал чIинххазулги кIудияб гохI лIугьунеб. fiCinal zin{a#ulgi judiyab go\ /uhuneb. 544. ГIиссинккун тIинкIулебги лълъим лъарахъе щолебила. fiCinKun Tinjulebila :im ;ara]e &olebila. 545. ГIиссинлъималазул лъелав ццевехъан. fiCin;imala#ul ;elaw Cewe]an. 546. ГIишкъуе чIалгIен гьечIеб, балаялълъе ссвак гьечIеб. fi^quye zalfen hezeb, balaya:e Swak hezeb. 547. ГIиядеги инаро, чуриги чIчIикIиларо. fiyadegi inaro, xurigi Zijilaro. 548. ГIияе бокьухъе бацI хвеларо. fiyaye bopu]e ba` [welaro. 549. ГIи къинлъиялдаги хурул хьоналдаги ххадув чи гъоларев. fi qin;iyaldagi [urul %onaldagi {aduw xi volarew. 550. ГIиял рехъеналълъе цо бацIги гIемераб. fiyal re]ena:e co ba`gi femerab. 551. ГIиялI цIцIелъуналдасса цIцIаналI дегIенлъунго лълъикI. fiya/ ~e;unaldaSa ~ana/ defen;ungo :ij. 552. ГIодизе ккедал – йоххарай, йоххизе ккедал – гIодарай. fodi#e Kedal - yo{aray, yo{i#e Kedal - fodaray. 553. ГIодичIони лъимадуе керен кьолареб. fodizoni ;imaduye keren polareb. 554. ГIодоб батани катан кьолев, куй къинлъани кьегIер кьолев. fodob batani katan polew, kuy qin;ani pefer polew. 555. ГIодоб лъезе тIину гуреб, кодобе босизе гIоркь гуреб. fodob ;e#e Tinu gureb, kodobe bosi#e forp gureb. 556. ГIодоб ракь босарасс тIад битIун зобги босулеб. fodob rap bosaraS Tad biTun #obgi bosuleb. 557. ГIодоб – турут, таххида – маххмар. fodob - turut, ta{ida - ma{mar. 558. ГIодобакI – бечедаб жо. fodobaj - bexedab $o. 559. ГIодобе биччараб накIкIил кьерхен ххалатаб. fodobe biXarab naJil per[en {alatab. 560. ГIодобе реххараб жоялълъе кодобе босулев чи камуларевила. fodobe re{arab $oya:e kodobe bosulew xi kamularewila. 561. ГIодобе реххуге, гIодосса босе. fodobe re{uge, fodoSa bose. 562. ГIодобе туни – мегеж, эххеде туни – михъал. fodobe tuni - mege$, e{ede tuni - mi]al. 563. ГIодобе тIураб лълъим тIад буссунареб. fodobe Turab :im Tad buSunareb. 564. ГIодов – гIадатав, чотIа – аздагьо (ХIажимурадил хIакъалълъулI). fodow - fadataw, xoTa - a#daho (\a$imuradil \aqa:u/). 565. ГIодов чIчIолелълъул къулиялълъухъ ралагье, тIаде вахъунелълъул ворххиялълъухъ ралагье. fodow Zole:ul quliya:u] ralahe, Tade wa]une:ul wor{iya:u] ralahe. 566. ГIодов чIчIун вукIинегIан чIобого хIалтIулев вукIинги лълъикIаб. fodow Zun wujinefan zobogo \alTulew wujingi :ijab. 567. ГIодове валагьичIого векерарассул квергIаги гIодоб чIвала. fodowe walahizogo wekeraraSul kwerfagi fodob zwala. 568. ГIодове виччан вилълъа, унелълъуве щвезе, ххеххлъичIого кIалъай, мекъсса ккунгутIизе. fodowe wiXan wi:a, une:uwe &we#e, {e{;izogo ja;ay, meqSa KunguTi#e. 569. ГIодове виччан вилълъарасс нух гIемер толеб. fodowe wiXan wi:araS nu[ femer toleb. 570. ГIодой йикIун тIала гурей, тIаде яхъун мерго гурей. fodoy yijun Tala gurey, Tade ya]un mergo gurey. 571. ГIодой чIчIани квенчIчIел цIурай, тIаде яхъани бащдаб щущарай. fodoy Zani kwenZel `uray, Tade ya]ani ba&dab &u&aray. 572. ГIодор ккун, тIаде рахъунила кIудиял гIолел, гъалатIал гьарулагойила гIакълуялде щолел. fodor Kun Tade ra]unila judiyal folel, valaTal harulagoyila faqluyalde &olel. 573. ГIодорчIчIей хIалхьияб жо бугоанила, гIодор чIчIарабгIан меххалълъ рахъун чIчIезе кколарелани. fodorZey \al%iyab $o bugoanila, fodor Zarabfan me{a: ra]un Ze#e Kolarelani. 574. ГIодоре риччан гьабураб хIалтIи лIугIулеб, цо хIохьолI, цо каралълъ чIван гьабураб ххутIулеб. fodore riXan haburab \alTi /ufuleb, co \o%o/, co kara: zwan haburab {uTuleb. 574. ГIодосса кибего унарин, цин туртидасса кванаян абулебила бакъалда бараб ролI кваназе рачIарал тIанчIазда къадкицца. fodoSa kibego unarin, cin turtidaSa kwanayan abulebila baqalda barab ro/ kwana#e razaral Tanza#da qadkiCa. 576. ГIодоссан зваргъи рагIарав, зодоссан дваргъи рагIарав. fodoSan #warvi rafaraw, #odoSan dwarvi rafaraw. 577. ГIодоссан регьел кьун тIегь баккуларо, тIассан бакъуццаги ххинлъи кьечIони. fodoSan rehel pun Teh baKularo, TaSan baquCagi {in;i pezoni. 578. ГIодулаго аниги ине ккола Гула гвандинибе, квен босун гIагIадулаго аниги ине ккола. fodulago anigi ine Kola gula gwandinibe, kwen bosun fafadulago anigi ine Kola. ХIажимурад гIурусазул рахъалде араб меххалълъ Шамилицца гьессул хъизан тусснахъалда жаний тIамун йиго. КIодоэбелалълъ ХIажимурадил гьитIинав вас Гула гвандинир тIамуразе квен босун витIулев вукIун вуго. Гула гьениве унаго цин гIодулев вукIун вуго, нахъеги жинццаго жиндиего гьадаб кицилъун ккараб гIакълуги кьун вуцIцIунев вукIун вуго. Жакъа гьаб кици хIалтIизабула, бокьаниги бокьичIониги, тIадаб иш тIубазабизе кколилан абураб магIнаялда. \a$imurad furusa#ul ra]alde arab me{a: ^amiliCa heSul ]i#an tuSna]alda $aniy Tamun yigo. jodoebela: \a$imuradil hiTinaw wac gula gwandinir Tamura#e kwen bosun wiTulew wujun wugo. gula heniwe unago cin fodulew wujun wugo, na]egi $inCago $indiyego hadab kici;un Karab faqlugi pun wu~unew wujun wugo. $aqa hab kici \alTi#abula, bopanigi bopizonigi, Tadab i^ Tuba#abi#e Kolilan aburab mafnayalda. 579. ГIодулареб бералдассаги цIунаги, гIорцIцIулареб чехьалдассаги цIунаги. fodulareb beraldaSagi `unagi, for~ulareb xe%aldaSagi `unagi. 580. ГIодун бахъараб хъала бихьичIо, гьардон щвараб гьунар бихьичIо. fodun ba]arab ]ala bi%izo, hardon &warab hunar bi%izo. 581. ГIодун - руцIцIунила лъимал гIолел. fodun - ru~unila ;imal folel. 582. ГIолохъанаб меххалълъ хIамаги берцинаб. folo]anab me{a: \amagi bercinab. 583. ГIолохъанго бахъинчIони чодул нухда хIур херлъараб меххалълъ бахъунаребила. folo]ango ba]inzoni xodul nu[da \ur [er;arab me{a: ba]unarebila. 584. ГIолохъанлъи мудалълъ кьолеб букIараб батани, херлъи ссахIицца кьолеб буго. folo]an;i muda: poleb bujarab batani, [er;i Sa\iCa poleb bugo. 585. ГIолохъанлъиялълъул рахIат босарав херлъидал зигардулев. folo]an;iya:ul ra\at bosaraw [er;idal #igardulew. 586. ГIолохъанлъуда лъачIеб рокьи щай, вакъидал щвечIеб квен щай? folo]an;uda ;azeb ropi &ay, waqidal &wezeb kwen &ay? 587. ГIолохъанчи диццаги рехханин, херав чиясс дунги рехханилан абурабила нухалълъ. folo]an;i diCagi re{anin, [eraw xiyaS dungi re{anilan aburabila nu[a:. 588. ГIолохъанчи нухалълъ чIвалевила, херав чиясс нух чIвалебила. folo]anxi nu[a: zwalewila, [eraw xiyaS nu[ zwalebila. 589. ГIолохъанчияссул кутак бергьараб, херав чияссул маххщел бергьараб. folo]anxiyaSul kutak berharab, [eraw xiyaSul ma{&el berharab. 590. ГIолохъанчияссул ракI – заз гIадаб жо. folo]anxiyaSul raj - #a# fadab $o. 591. ГIондокь кьиндал хисулеб, кьерагъо къойил хисулеб. fondop pindal [isuleb, peravo qoyil [isuleb. 592. ГIонкIкIода данде кетолъун вукIа, бацIида данде гъалбацIлъун вукIа. fonJoda dande keto;un wuja, ba`ida dande valba`;un wuja. 593. ГIонкIкIодассан ккараб тIинчIалълъ къвачIа букъичIого толареб. fonJodaSan Karab Tinza: qwaza buqizogo tolareb. 594. ГIонкIкIое кетоги гъалбацIила. fonJoye ketogi valba`ila. 595. ГIонкIкIол кето гьабуге, катил гъалбацI гьабуге. fonJol keto habuge, katil valba` habuge. 596. ГIонкIкIотIинчIалълъ къвачIа букъула, хъурмил тIинчIалълъ кьегIер чIвала. fonJoTinza: qwaza buqula, ]urmil Tinza: pefer zwala. 597. ГIонкIкIолаб гьабурассе катилаб гьабе. fonJolab haburaSe katilab habe. 598. ГIонкIкIолги букIунеб жиндаго рекъараб цIуна-къай, гIанххрилги букIунеб жиндаго рекъараб рукъалълъул низам. fonJolgi bujuneb $indago reqarab `una-qay, fan{rilgi bujuneb $indago reqarab ruqa:ul ni#am. 599. ГIонкIкIоцца букъун къвачIа тIагIинаро. fonJoCa buqun qwaza Tafinaro. 600. ГIонкIкIоцца инкар ккун кето чIчIоларо, квегIенлъи ккарабго тIад речIчIичIого. fonJoCa inkar Kun keto Zolaro, kwefen;i Karabgo Tad reZizogo. 601. ГIор бахун ххадуб кьо щай? for ba[un {adub po &ay? 602. ГIор бахунеб меххалълъ гурони, чIчIегIерабги хъахIабги нахъияб рахъ лъалареб. for ba[uneb me{a: guroni, Zeferabgi ]a\abgi na]iyab ra] ;alareb. 603. ГIор кьодухъе буссуна, чу кьолокье буссуна. for podu]e buSuna, xu polope buSuna. 604. ГIор кIодолъизейилан кIващ биччалареб. for jodo;i#eyilan jwa& biXalareb. 605. ГIор ххалалъухъе кьо балареб. for {ala;u]e po balareb. 606. ГIор щун букIаго, цIул бахъе. for &un bujago, `ul ba]e. 607. ГIорал ралъдахъе уна, гьерссал гьороцца уна. foral ra;da]e una, herSal horoCa una. 608. ГIоралдасса хоно тIокIлъаниги, гIемерал ругилан эбел-инссуе лъимал тIокIлъуларел. foraldaSa [ono Toj;anigi, femeral rugilan ebel-inSuye ;imal Toj;ularel. 609. ГIоралълъ восун унесс хIотол нихьваялдеги квер ххапулеб. fora: wosun uneS \otol ni%wayaldegi kwer {a_uleb. 610. ГIорго бихьилалде хьитал рахъуге (гIорго бихьилалде хьитал рахъарай). forgo bi%ilalde %ital ra]uge (forgo bi%ilalde %ital ra]aray). 611. ГIоркь-рачIчI гьечIеб рагIи бицун, мунго учуз гьавуге, дурго гIайибалги раххчун, чиядеги бугъуге. forp-raZ hezeb rafi bicun, mungo uxu# hawuge, durgo fayibalgi ra{xun, xiyadegi buvuge. 612. ГIоркь-рачIчI гьечIел рагIаби гIадамалълъе росуге. forp-raZ hezel rafabi fadama:e rosuge. 613. ГIоркьилав рокъов цIакъав, бахIарчи кьалда цIакъав. forpilaw roqow `aqaw, ba\arxi palda `aqaw. 614. ГIорхъолIа борчIараб бечелъи – баччизе захIматаб гьир. for]o/a borzarab bexe;i - baXi#e #a\matab hir. 615. ГIорцIцIараб къоялълъ михъал кIичIун, нахъиссеб къоялълъ михъал далун, нахърател букIунареб. for~arab qoya: mi]al jizun, na]iSeb qoya: mi]al dalun, na]ratel bujunareb. 616. ГIорцIцIараб рокъоб бакъараб кето. for~arab roqob baqarab keto. 617. ГIорцIцIарав гIеркъолевила, вакъарав семулевила. for~araw ferqolewila, waqaraw semulewila. 618. ГIорцIцIаразул ракI гъезе годекIанире унге. for~ara#ul raj ve#e godejanire unge. 619. ГIорцIцIарал бубудула, ракъарал мимидула. for~aral bubudula, raqaral mimidula. 620. ГIорцIцIарассда вакъарав лъаларев, ххинлъарассда вугьарав лъаларев. for~araSda waqaraw ;alarew, {in;araSda wuharaw ;alarew. 621. ГIорцIцIарассеялдасса вакъарассе кумек гьабизе бигьаябила. for~araSeyaldaSa waqaraSe kumek habi#e bihabila. 622. ГIорцIцIиялълъул макруялдассаги цIунаги, ракъиялълъул балагьалдассаги цIунаги. for~iya:ul makruyaldaSagi `unagi, raqiya:ul balahaldaSagi `unagi. 623. ГIорцIмада эмен цIеххедал, эбел гIала кколилан абурабила. for`mada emen `e{edal, ebel fala Kolilan aburabila. 624. ГIорцIцIул балагь ракъул балагьалдасса кIудияб. for~ul balah raqul balahaldaSa judiyab. 625. ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан бакъун эркенлъиялдаго лълъикIила. for~un lav;iyalda bujinefan baqun erken;iyalda :ijila. Кваназе жо балагьизе бачIунеб бацIида гьой данделъанила. - Дур кьаралъиго щиб? ЛълъиццагIаги мун гьеб хIалалълъ хьихьулеб? – ан гьикъанила бацIицца. - Рукъ-бакI цIунаралълъухъ бетIергьанасс хьихьула, – ян абунила гьойцца. Жинццаги цIунилаанин рукъ-бакI, кваназе жо кьолеб батаниян абунила бацIицца. Разилъанила гьой бацI росулIе бачине. Гьой ццебе-ццебе букIанила, бацI ххадуб букIанила. БацIицца гьойда гьикъанила гьеб дур габуралълъе лIугьараб жо щибилан. Раххссицца хIулизабун бугилан абунила гьойцца. - Гьедин батани, билълъинаро дун дуда цадахъ! ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан, бакъун эркенлъиялдаго бокьила! Гьединги абун, бацI рохьобеххун балагьун анила. kwana#e $o balahi#e bazuneb ba`ida hoy dande;anila. - dur para;igo &ib? :iCafagi mun heb \ala: %i%uleb? - an hiqanila ba`iCa. - ruq-baj `unara:u] beTerhanaS %i%ula, - yan abunila hoyCa. $inCagi `unilaanin ruq-baj, kwana#e $o poleb bataniyan abunila ba`iCa. ra#i;anila hoy ba` rosu/e baxine. hoy Cebe-Cebe bujanila, ba` {adub bujanila. ba`iCa hoyda hiqanila heb dur gabura:e /uharab $o &ibilan. ra{SiCa \uli#abun bugilan abunila hoyCa. - hedin batani, bi:inaro dun duda cada]! for~un lav;iyalda bujinefan, baqun erken;iyalda bopila. hedingi abun, ba` ro%obe{un balahun anila. 626. ГIорцIцIун ххадуб квараб – шайтIаналълъейила. for~un {adub kwarab - ^ayTana:eyila. 627. ГIочIотIа чIван, чIалитIа ххун. fozoTa zwan, zaliTa {un. 628. ГIощтIода рекъарабила гIоркьги букIунеб. fo&Toda reqarabila forpgi bujuneb. 629. ГIощтIода ххадуб гIоркь реххуге. fo&Toda {adub forp re{uge. 630. ГIощтIое рохь гурев, рохьдое мегIер гурев. fo&Toye ro% gurew, ro%doye mefer gurew. 631. ГIощтIолгун кьал ахIун, гIоркьгун рекъоге. fo&Tolgun pal a\un, forpgun reqoge. 632. ГIужда квегъичIеб барти квегъуд буссунаро, гIужда хIалтIичIел кверал нахъа ругьунлъуларо. fu$da kwevizeb barti kwevud buSunaro, fu$da \alTizel kweral na]a ruhun;alaro. 633. ГIужда чIор гIабдалассухъаги щвезе бегьулеб. fu$da zor fabdalaSu]agi &we#e behuleb. 634. ГIужилав чанахъанассул гула алххунаро, гIакъилав чияссул рагIи гIодоб ххутIуларо. fu$ilaw xana]anaSul gula alqunaro, xiyaSul xiyaSul rafi fodob {uTularo. 635. ГIужрукъалълъ тIанчIазда абулебила, нуж бищунго хIеренал, хIули гIадал тамахал. fu$ruqa: Tanza#da abulebila, nu$ bi&ungo \erenal, \uli fadal tama[al. 636. ГIужрукъалълъул багьа цIакихъ кьоге, гIадамассе къимат ратIлихъ кьоге. fu$ruqa:ul baha `aki] poge, fadamaSe qimat raTli] poge. 637. ГIумру бугила гIурччинаб ххер гIадаб жо, балагьалдасса ххвассарлъаниги, ххарицелалдасса борчIулареб. fumru bugila furXinab {er fadab $o, balahaldaSa {waSar;anigi, {aricelaldaSa borzulareb. 638. ГIумру кьурасс хвелги кьолебила. fumru puraS [welgi polebila. 639. ГIумруги бихьарав, бихьанщинабги хIехьарассул гурони, чIара-хьараб гIамал-ххассият букIунареб. fumrugi bi%araw, bi%an&inabgi \e%araSul guroni, zara-%arab famal-{aSiyat bujunareb. 640. ГIумруги талихIила, хвелги талихIила. fumrugi tali\ila, [welgi tali\ila. 641. ГIумруялда рекъарабила хвел букIунеб. fumruyalda reqarabila [wel bujuneb. 642. ГIумруялълъул аххир къанда хIарщ речIчIидал лъала. fumruya:ul a{ir qanda \ar& reZidal ;ala. 643. ГIун бачIунеб гIелалълъ тараб цIцIали – гIун бачIунеб гъотIода бараб хIапаро. fun bazuneb fela: tarab ~ali - fun bazuneb voToda barab \a_aro. 644. ГIунараб катицца гIорчо кIудияб хъамулеб (ГIунараб катицца гьорчо кIудияб биччалеб). funarab katiCa forxo judiyab ]amuleb (funarab katiCa horxo judiyab biXaleb). 645. ГIунарассул лъорове вугьарав лIугьаравила. funaraSul ;orowe wuharaw /uharawila. 646. ГIундул рихьун – хIама, рачIчI бихьун – дегIен. fundul ri%un - \ama, raZ bi%un - defen. 647. ГIункIкI бечIчIулев, кIкIара чIунтIулев (ГIункIкIбечIчI, кIкIарачIунтI). funJ beZulew, Jara zunTulew (funJbeZ, JarazunT). 648. ГIункIкI кIурщунилан лъар хъублъулареб. funJ jur&unilan ;ar ]ub;ulareb. 649. ГIункIкIаз гIащтIи букъи – багьана. funJa# fa&Ti buqi - bahana. 650. ГIункIкI кквезегIан, кетоги беццуге, цер кквезегIан, бахIриги беццуге. funJ Kwe#efan, ketogi beCuge, cer Kwe#efan, ba\rigi beCuge. 651. ГIункIкI – цагъринибе, цер – авлахъалде. funJ - cavrinibe, cer - awla]alde. 652. ГIункIкIги кетоги рекъани, бакъал тукен ххараблъула. funJgi ketogi reqani, baqal tuken {arab;ula. 653. ГIурав васасс корол хIамул рухъулел. furaw wasaS korol \amul ru]ulel. 654. ГIурай яс гIодизе бачIараб бацIие кье. furay yas fodi#e bazarab ba`iye pe. 655. ГIурай яс рокъой йигони, нусалълъе рахIат толареб. furay yas roqoy yigoni, nusa:e ra\at tolareb. 656. ГIурай яцц рокъой йигони, ваццассда вегун макьу щолареб. furay yaC roqoy yigoni, waCaSda wegun mapu &olareb. 657. ГIурассдасса воххуларев, хварассухъ гIодуларев. furaSdaSa wo{ularew, [waraSu] fodularew. 658. ГIурда хIал гьабуге, хурда дагь гьабуге (ГIуру гIемер суге, хур дагьаб бекьун тоге). furda \al habuge, [urda dah habuge (furu femer suge, [ur dahab bepun toge). 659. ГIурул ханазул гьабун къед чIчIолареб. furul [ana#ul habun qed Zolareb. 660. ГIурул хъуй тIагIаниги, гьекъолдухъанассул рокъоб питна тIагIунареб. furul ]uy Tafanigi, heqoldu]anaSul roqob _itna Tafunareb. 661. ГIурул хIари гIуруцца уна, лъарал хIари лъарацца уна. furul \ari furuCa una, ;aral \ari ;araCa una. 662. ГIурул чваххи хисаниги, чияссул гIамал хисуларебила. furul xwa{i [isanigi, xiyaSul famal [isularebila. 663. ГIурулI вукIун лълъим щоларев, лъаргIив вукIун ххер щоларев. furu/ wujun :im &olarew, ;arfiw wujun {er &olarew. 664. ГIуруцца лъарал гьаракь къотIизарурал къоял рачIунгеги, къоязул сардал гьарурал сонал рачIунгеги. furuCa ;aral harap qoTi#arural qoyal razungegi, qoya#ul sardal harural sonal razungegi. 665. ГIурхъиги аххирги ссундулго букIунебила. fur]igi a{irgi Sundulgo bujunebila. 666. ГIурччингобарщ. furXingobar&. 667. ГIурччинлъи савуялълъ бухIула, гIадан рекIел гьаваялълъ вухIула. furXin;i sawuya: bu\ula, fadan rejel hawaya: wu\ula. 668. ГIусазда хIал букIаго бекейила гьоло. fusa#da \al bujago bekeyila holo. 669. ГIусал рикIунилан чехь гIорцIцIулареб. fusal rijunilan xe% for~ulareb. 670. ГIухьби гIемераб гIи бацIицца гъурулеб. fu%bi femerab fi ba`iCa vuruleb. 671. ГIухьби гIемерлъанагIан гIи дагьлъулеб. fu%bi femer;anafan fi dah;uleb.

  • xx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    К k Каву къасси рахай, гъамасс кидаго рахай. kawu qaSi ra[ay, vamaS kidago ra[ay. Каву кIудиялълъуве гьардухъан валагьулев, рукъ бечедалълъуе яс ялагьулей. kawu judiya:uwe hardu]an walahulew, ruq bexeda:uye yas yalahuley. Каву тезегIан – тIехх, тIох тезегIан – карщ. kawu te#efan - Te{, To[ te#efan - kar&. Кагътида хъвачIеб гIелму – лълъадада хъвараб накъищ. kavtida ]wazeb felmu - :adada ]warab naqi&. КагIбаялълъул тIохда рещтIарал чIчIегIерал гъудул рихьулев, жиндаго ццебе бугеб пулавалда гъоркь кишмиш бихьуларев. kafbaya:ul To[da re&Taral Zeferal vudul ri%ulew, $indago Cebe bugeb _ulawalda vorp ki^mi^ bi%ularew. Аваристаналълъул ххан ГIумахханассул Баххухъе ХIамщаралдасса вакилзаби рачIун рукIун руго. awaristana:ul {an fuma{anaSul ba{u]e \am&araldaSa wakil#abi razun rujun rugo. Гара-чIвариялда рукIаго, вакилзабазул цоясс берал къанщун руго, ссородизе лIугьун вуго, ццере квералги ккун, дугIа гьабизе лIугьун вуго. Щибин ккараб, щайин рахIат хварабан цIеххедал, гьесс абун буго, жив вугила балъголъи лъалев, кигIан рикIкIада бугониги, лIугьунеб - толеб жо бихьулев чи. Дагьаб ццебе КагIбарукъалълъул тIохда чIчIегIерал гъудул рещтIанила. Гьеб бихьидал, сири банила жиндир черххалда. gara-zwariyalda rujago, wakil#aba#ul coyaS beral qan&un rugo, Sorodi#e /uhun wugo, Cere kweralgi Kun, dufa habi#e /uhun wugo. &ibin Karab, &ayin ra\at [waraban `e{edal, heS abun, $iw wugila ba;go;i ;alew, kifan riJada bugonigi, /uhuneb - toleb $o bi%ulew. dahab Cebe kafbaruqa:ul To[da Zeferal vudul re&Tanila. heb bi%idal, siri banila $indir xer{alda. Къажаразул мурад букIун буго, гара-чIвари гьабулаго, щибниги жидедасса балъго гьабуни, гьеб тIатинчIого ххутIуларилан хханассул гIакълучагIи хIинкъизаризе. qa$ara#ul murad bujun bugo, gara-zwari habulago, &ibnigi $idedaSa ba;go habuni, heb Tatinzogo {uTularilan {anaSul faqluxafi \inqi#ari#e. Гьеб бичIчIарав Баххубикал цо гIакълучиясс гьев гьадин къватIив чIвазавун вуго. Гьалбадерида ццебе квен лъелалде, гьесс богогьанассда лъазабун буго - «балъголъи лъалессда» ццебе пулав кишмишги гъорлIе ккезабун лъейила, цогидазда ццебе тIаде ккезабун лъейилан. heb biZaraw ba{ubikal co faqluxiyaS hew hadin qwaTiw zwa#awun wugo. halbadereda Cebe kwen ;elalde, heS bogohanaSda ;a#abun bugo - «ba;go;i ;aleSda» Cebe _ulaw ki^mi^gi vor/e Ke#abun ;eyila, cogida#da Cebe Tade Ke#abun ;eyilan. Байбихьанила кваназе. «Балъголъи лъалев», цин жиндирго гъадриниве валагьун, цин гьалмагъзабазул гъудрунире валагьун, рахIат хун лIугьанила. Ххадуб, гьалълъие гIила щибин, жиндие щайин кишмиш лъечIебан ццидахханила. baybi%anila kwana#e. «ba;go;i ;alew», cin $indirgo vadriniwe walahun, cin halmav#aba#ul vudrunire walahun, ra\at [un /uhanila. {adub, ha:iye fila &ibin, $indiye &ayin ki^mi^ ;ezeban Cida{anila. ВахIин, дора КагIбаялълъул тIохда рещтIарал чIчIегIерал гъудул рихьулев дуда берда ццебе бугеб хъахIаб пулавалда гъоркь бугеб кишмиш бихьуларебищан абунила гьессда хханассул гIакълучиясс. wa\in, dora kafbaya:ul To[da re&Taral Zeferal vudul ru%ulew duda berda Cebe bugeb [a\ab _ulawalda vorp bugeb ki^mi^ bi%ularebi&an abunila heSda {anaSul faqluxiyaS. Чара хванила «балъголъи лъалессул». КагIитIа гьабураб гьойтIаги гьабулебила. xara [wanila «ba;go;i ;aleSul». kafiTa haburab hoyTagi habulebila. Как ахIунилан сордо рогьинаро. kak a\unilan sordo rohinaro. Какун гIака бичулареб. kakun faka bixulareb. Калам дагьлъи беццараб, рекIеда нур балеб жо, гIемер кIалъай какараб, каранлI пардав лъолеб жо. kalam dah;i beCarab, rejeda nur baleb $o, femer ja;ay kakarab, karan/ _ardaw ;oleb $o. Каламалда жаниб бищунго нахъегIанаб жо – гьересси, гьерссазда гьоркьобги цIакъго хъубаб жо – мацIцI гьаби. kalamalda $anib bi&ungo na]efanab $o - hereSi, herSa#da horpobgi `aqgo ]ubab $o - ma~ habi. Каламалълъул гьуинлъи – кIалъазе лъай. kalama:ul huin;i - ja;a#e ;ay. Камал камураб каратI букIунареб, жонссокъ камураб къайи букIунареб. kamal kamurab karaT bujunareb, $onSoq kamurab qayi bujunareb. Камиллъидал моцIцIги тIасса бекулеб. kamil;idal mo~gi TaSa bekuleb. Канлъи гьечIони, рагIадги букIунареб. kan;i hezoni, rafadgi bujunareb. Капек камун, шагьи босуларо, шагьи камун, гъурущ босуларо. ka_ek kamun, ^ahi bosularo, ^ahi kamun, vuru& bosularo. Капурчияссеги гьабугеги чияр жо бикъулеб лъимер. ka_urxiyaSegi habugegi xiyar biquleb ;imer. КаралI чIван, хIохьолI чIван. kata/ zwan, \ono/ zwan. Каранццайин МухIума реххарав. karanCayin mu\uma re{araw. КартIинибе квер бегьани, гIонкIкIоццаги хIанчIулеб. karTinibe kwer behani, fonJoCagi \anzuleb. Карщ бакъвалъизегIан рущи щваларей, тIехх лълъамалъизегIан лълъим тIоларей. kar& baqwa;i#efan ru&i &walarey, Te{ :ama;i#efan :im Tolarey. Карщни лълъикIаб бугоан, чи гIемер гьечIевани. ЧIчIужуялълъ карщ гьабун буго ва россассда гьикъун буго карщ лълъикIаб бугищилан. - Карщни лълъикIаб бугоан, – ан абун буго россасс, – чи гIемер гьечIевани. - Мунги дунги гурони, анив батIияв чи гьечIо гури! – ян чIчIужу тамашалъун ххутIараб меххалълъ, къарумав россасс гьелда абун буго. - Гьедин гурохха дие къваригIун букIараб, хьагги дунги рукIине къваригIун букIана. - ЦIакъ лълъикI ккун буго! Гьанже рукIа хьагги мунгоги! – ян чIчIужуялълъ ххазабун буго. 22. Катида ххадуб ракI хванилан гIоди – гIонкIкIолги гьересси, нуцалчияссда ххадуб ракI хванилан аби – мискинчияссулги гьересси. katida {adub raj [wanilan fodi - fonJolgi hereSi, nucalxiyaSda {abub raj [wanilan abi - miskinxiyaSulgi hereSi. 23. Катида ццебе моххмохх тоге, гIун ххадуй рокъой ясги тоге. katida Cebe mo{mo{ toge, fun {aduy roqoy yasgi toge. 24. Катие – бертин, гIонкIкIое – балагь. katiye - bertin, fonJoe - balah. 25. Катие – гажи, гIонкIкIое – хвел. katiye - ga$i, fonJoe - [wel. 26. Катие – маххссаро, гIонкIкIое – гажи. katiye - ma{Saro, fonJoe - ga$i. 27. Катил туххум – цойила. katil tu{um - coyila. Авараз гьаб кици гIунтIизабула цо гъазигъумекиссессде. Гьессие катицца кIудияб зарал гьабун букIарабила. Цинги гьессги, катил туххум цо бугилан, киб батарабги кето буххулеб букIарабила. (Кици тIамула «Квешал умумуз гьабураб гурони, лъималазги щиб гьабилеб!» абураб магIнаялда). awara# hab kici funTi#abula co va#ivumekiSeSde. heSiye katiCa judiyab #aral habun bujanila. cingi heSgi, katil tu{um co bugilan, kib batarabgi keto bu{uleb bujarabila. (kici Tamula «kwe^al umumu# haburab guroni, ;imala#gi &ib habileb!» aburab mafnayalda). 28. Катикьа хIинкъун, къватIибе бахъинчIеб гIункIкI картIинибго хварабила. katipa \inqun, qwaTibe ba]inzeb funJ karTinibgo [warabila. 29. Кваназе бокьараб меххалълъ катицца жиндирго тIинчI рахъдалI чIва-чIварабила. kwana#e boparab me{a: katiCa $indirgo Tinz ra]da/ zwa-zwarabila. 30. Кваназе кIваги, гьекъезе кIваги. kwana#e jwagi, heqe#e jwagi. 31. Кваназе лъачIони хIалакълъула, хIалтIизе лъачIони мискинлъула. kwana#e ;azoni \alaq;ula, \alTi#e ;azoni miskin;ula. 32. Кваназе чадихъ чармабич, чIамизе сокъсохъ чIахъенбич. kwana#e xadi] xarmabix, zami#e soqso] za]enbix. 33. Кваназеги ретIинеги лълъидаго лъалеб, букIинабизегийин лъазе кколеб. kwana#egi reTinegi :idago ;aleb, bujinabi#egiyin ;a#e Koleb. 34. Кваназе жо гьечIого гурелила гьоболлъухъ унел. kwana#e $o hezogo gurelila hobol;u] unel. 35. Кванай вакъидал, рокьи гIолохъанго гьабе. kwanay waqidal, ropi fola]ango habe. 36. Кванай кьарияв, хIалтIи хIалакъав. kwanay pariyaw, \alTi \alawaq. 37. Кваналаго кIалдиб къачIони, къулчIчIулаго щокъроб къалеб. kwanalago jaldib qazoni, qulZulago &oqrob qaleb. 38. Кваналареб хIамицца ХIоццомегIер бегулареб. kwanalareb \amiCa \oComefer begulareb. 39. Кваналарищан абураб жо – кванагеян абураб жо, гьекъеларищан абураб жо – гьекъогеян абураб жо. kwanalari&an aburab $o - kwanageyan aburab $o, heqelari&an aburab $o - heqogeyan aburab $o. 40. Кваналев, гьекъолев, бокьанщинаб гьабулев чи гуро саххаватав чи - «саххаватав чи» вуго, кваназе, гьекъезе кIвечIого, чияе боцIцIи данде гьабулев чи. kwanalew, heqolew, bopan&inab habuleb xi guro sa{awataw xi - «sa{awataw xi» wugo, kwana#e, heqe#e jwezogo, xiyaye bo~i dande habulew xi. 41. Кваналел ратани, кванай, хIалтIулел ратани, хIалтIе. kwanalel ratani, kwanay, \alTulel ratani, \alTe. 42. Кваналел таги, гьекъолел таги, тIассан рорчIугеги. kwanalel tagi, heqolel tagi, TaSan rorzugegi. 43. Кваналареб баси басандулареб. kwanalareb basi basandulareb. 44. Кванан бахъарабдай, нахъе тарабдай? kwanan ba]arabday, na]e tarabday? 45. Кванан рахъараб меххалълъ, рукъ чиярлъулеб. kwanan ra]arab me{a:, ruq xiyar;uleb. 46. Кванан гIорцIцIуларев чIчIикIунги гIорцIцIиларо. kwanan for~ularew Zijungi for~ilaro. 47. Кванараб хIарччинибе хIацIцIу туге. kwaranab \arXinibe \a~u tuge. 48. КваначIого, гьекъечIого вакъизеги вукIунге, гIемер кванан, гIемер гьекъон, къаличехьги гьабуге. kwanazogo, heqezogo waqi#egi wujunge, femer kwanan, femer heqon, qalixe%gi habuge. 49. КваначIого хIалтIани, черхх нахъе кколеб, хIалтIичIого кванани, рукъ нахъе кколеб. kwanazogo \alTani, xer{ na]e Koleb, \alTizogo kwanani, ruq na]e Koleb. 50. КваначIого хIалтIуге, хIалтIичIого кванаге. kwanazogo \alTuge, \alTizogo kwanage. 51. Кванда квешабилан абизе бегьуларебила. kwanda kwe^abilan abi#e behularebila. 52. Кванил гурони мацIцI лъаларев кванил багьаяв вукIунарев. kwanil guroni ma~ ;alarew kwanil bahayaw wujunarew. 53. Кванил тIагIам хварассе ххарбил кеп букIунареб. kwanil Tafam [waraSe {arbil ke_ bujunareb. 54. Кванда чIухIуларев хIалтIудаги чIухIуларев. kwanda zu\ularew \alTudagi zu\ularew. 55. Кваницца – кьер, макьицца – гьан. kwaniCa - per, mapiCa - han. 56. Квар ххалатаб лълъикIаб, ххабар къокъаб лълъикIаб. kwar {alatab :ijab, {abar qoqab :ijab. 57. Кварабги гьекъарабги – нилIер, кваначIого, гьекъечIого тараб – чияр. kwarabgi heqarabgi - ni/er, kwanazogo, heqezogo tarab - xiyar. 58. Кваралълъ – эххеде, ххуралълъ – гIебеде. kwara: - e{ede, {ura: - febede. 59. Кваранаб квералълъ кьураб квегIалда лъазе биччагейила. kwaranab kwera: purab kwefalda ;a#e biXageyila. 60. Кваркьи-милъир гьечIони, цIцIудуцца чан чIваларо. kwarpi-mi;ir hezoni, ~uduCa xan zwalaro. 61. КвартIа кьабичIого, кьекIкIел къваригIарав къадахъан – къо бихьичIого, мухь къваригIарав ххадучи. kwarTa pabizogo, peJel qwarifaraw qada]an - qo bi%izogo, mu% qwarifaraw {aduxi. 62. КвартIицца гIуж лъунилан, гIарцул къимат холаро. kwarTiCa fu$ ;unilan, farcul qimat [olaro. 63. Квасуе гIоло гьой къунцIулареб. kwasuye folo hoy qun`ulareb. 64. Квасул куналълъ зоб кквеларо, зулмучиясс ракь кквеларо. kwasul kuna: #ob Kwelaro, #ulmuxiyaS rap Kwelaro. 65. Квасул куналда ххураб ххородул къвали гIадаб жо. kwasul kunalda {urab {orodul qwali fadab $o. 66. Квасул кунгIан тIеренлъулебила диналълъул габур, бугъелгIан биццалъулебила. kwasul kunfan Teren;ulebila dina:ul gabur, buvelfan biCa;ulebali. 67. КватIарассе кьей гьечIеб, кьижарассе тей гьечIеб. kwaTaraSe pey hezeb, pi$araSe tey hezeb. 68. КватIун бекьараб хур лълъикI бачIараблъи лъималазда бицунге. kwaTun beparab [ur :ij bazarab;i ;imala#da bicunge. 69. Квачан цо рас бортиялдасса ххинлъун мегеж хIулиго лълъикI. (Квачан цо рас бортизегIан, ххинлъун цIцIоко хIулиго бокьилилан абулебила царацца). kwaxan co ras bortiyaldaSa {in;un mege$ \uligo :ij. (kwanan co ras borti#efan, {in;un ~oko \uligo bopililan abulebila caraCa). 70. Квачан чIухIиялдасса ххинлъун чIухIи лълъикIаб. kwanan zu\iyaldaSa {in;un zu\i :ijab. 71. Квачараб рии ххинаб ххаселалдасса ххинабила. kwaxarab rii {inab {aselaldaSa {inabila. 72. Квен вакъидал квинегIан те, дару унти чIвараб сагIат гьабе. kwen waqidal kwinefan te, daru unti zwarab safat habe. 73. Квен гьабизе жо тIагIараб меххалълъ, жибги бичеян абурабила хьагицца. kwen habi#e $o Tafarab me{a:, $ibgi bixeyan aburabila %agiCa. 74. Квен лълъикIаб гьоболгун цадахъ квараб, гьобол лълъикIав божизе бегьулев. kwen :ijab hobolgun cada] kwarab, hobol :ijaw bo$i#e behulew. 75. Квен ригьда кванай, как гIужда бай. kwen rihda kwanay, kak fu$da bay. 76. Квен те, ххиял букIаго, калам те, гьуин букIаго. kwen te, {iyal bujago, kalam te, huin bujago. 77. Квен тIагIамалдассан лъалеб, устар тIагIалидассан лъалев. kwen TafamaldaSan ;aleb, ustar TafalidaSan ;alew. 78. Квен цIеххон, гьобол вачIунарев. kwen `e{on, hobol wazunarew. 79. Квен - къелалълъул гьудуллъи къо ккедал батуларо. kwen - qela:ul hudul;i qo Kedal batularo. 80. Квен-тIехх рекъезабуни, дару къваригIунареб, гIакълуялда хьвадани, нухда мекъи кколарев. kwen-Te{ reqe#abuni, daru qwarifunareb, faqluyalda %wadani, nu[da meqi Kolarew. 81. КвенчIчIелалде хъублъи гьабунилан лъимер гIодобе реххулареб. kwenZelalde ]ub;i habunilan ;imer fodobe re{ulareb. 82. Квер багъаричIони, кIал багъаруларо. kwer bavarizoni, jal bavarularo. 83. Квер кIобокIунилан килищ бортулареб. kwer jobojunilan kili& bortulareb. 84. Квер ракул цIечIони, кIал нахул цIолареб. kwer rakul `ezoni, jal na[ul `olareb. 85. Кверазда хIур хъваларев хIалтIухъан вукIунарев. kwera#da \ur ]walarew \alTu]an wujunarew. 86. Кверазе хIалтIи – рекIее рахIат. kwera#e \alTi - rejeye ra\at. 87. Кверзул маххссара гьабуни, черххалълъул хIал лъала, кIалзул маххссара гьабуни, рекIел хIал лъала. kwer#ul ma{Sara habuni, xer{a:ul \al ;ala, jal#ul ma{Sara habuni, rejel \al ;ala. 88. Кверал къокъ, мацIцI ххалат. kweral qoq, ma~ {alat. 89. Кверал меседилай, рукъи гIарцулай. kweral mesedilay, ruqi farculay. 90. Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо. kweral \alTizoni, cabi \alTularo. 91. Кверал хIалтIула, бетIералълъ малълъула. kweral \alTula, beTera: ma:ula. 92. Кверал чIахъад, маххщел гьечI. kweral za]ad, ma{&el hez. 93. Кверазда килщалги ращадал рукIунаро. kwera#da kil&algi ra&adal rujunaro. 94. Квералълъ бичизеги кIолареб, кIалалълъ бичизеги бегьулареб. kwera: bixi#egi jolareb, jala: bixi#egi bthulareb. 95. Квералълъ бичизеги хIацIихьараб, кIалалълъ бичизеги ракул цIураб. kwera: bixi#egi \a`i%arab, jala: bixi#egi rakul `urab. 96. Квералълъ гьабураб – рукъалълъе, кIалалълъ бицараб – гIакълуялълъе. kwera: haburab - ruqa:e, jala: bicarab - faqluya:e. 97. Квералълъ кьураб хIетIалълъ балагьизе ккола. kwera: purab \eTa: balahi#e Kola. 98. Кверзул маххссараги гьабуге, кколареб бакIалда рагIиги бицунге. kwer#ul ma{Saragi habuge, Kolareb bajalda rafigi bicunge. 99. Квеш ккелилан ккараб ригьин лълъикIги кколебила, лълъикI ккелилан ккараб квешги кколебила. kwe^ Kelilan Karab rihin :ijgi Kolebila, :ij Kelilan Karab kwe^gi Kolebila. 100. Квеш хIалтIарассул – хIамицца, хIал барассул – гьакицца. kwe^ \alTaraSul - \amiCa, \al baraSul - hakiCa. 101. Квешаб бугилан квералдасса килищ къотIулареб. kwe^ab bugilan kweraldaSa kili& qoTulareb. 102. Квешаб гьецIо квешаб гьецIоялда рекъолеб, квешав чи квешав чияссда рекъолев. kwe^ab he`o kwe^ab he`oyalda reqoleb, kwe^aw xi kwe^aw xiyaSda reqolew. 103. Квешаб гьойцца хъублъи гьатIнибги гьабулебила. kwe^ab hoyCa ]ub;i haTnibgi habulebila. 104. Квешаб жо гIемер буго, бищунго квешазул цояб мискинлъиги буго. kwe^ab $o femer bugo, bi&ungo kwe^a#ul coyab miskin;igi bugo. 105. Квешаб зазида лълъикIаб тIегь бижизеги бегьулеб, лълъикIаб гъотIода квешаб пихъ бижизеги бегьулеб. kwe^ab #a#ida :ijab Teh bi$i#egi behuleb, :ijab voToda kwe^ab _i] bi$i#egi behuleb. 106. Квешаб матIуялда жаниссан лълъикIаб жоги квешаблъун бихьулеб. kwe^ab maTuyalda $aniSan :ijab $ogi kwe^ab;un bi%uleb. 107. Квешаб нухдассан рещтIунилан хварав цониги вихьичIо, рекIун хварав гIемер вихьана. kwe^ab nu[daSan re&Tunilan [waraw conigi wi%izo, rejun [waraw femer wi%ana. 108. Квешаб ракь букIунаребила, квешал бетIергьаби гьечIони. kwe^ab rap bujunarebila, kwe^al beTerhabi hezoni. 109. Квешаб тезе тавпикъ кьеги, лълъикIаб кквезе гIакълу кьеги. kwe^ab te#e taw_iq pegi, :ijab Kwe#e faqlu pegi. 110. Квешаб ххабар рагIугеги, гьанал гьоко бачIунгеги. kwe^ab {abar rafugegi, hanal hoko bazungegi. 111. Квешаб хIама хIалтIулI къинлъула. kwe^ab \ama \alTu/ qin;ula. 112. Квешабги лълъикIабги гIамал жиндирго рокъоссанила. kwe^abgi :ijabgi famal $indirgo roqoSanila. 113. КвешабгIан ххабар ххеххго тIибитIун унеб. kwe^abfan {abar {e{go TibiTun uneb. 114. Квешав васасс инссул цIцIар хвезабула. kwe^aw wasaS inSul ~ar [we#abula. 115. Квешав васассдасса лълъикIав дурццго лълъикI. kwe^aw wasaSdaSa :ijaw durCgo :ij. 116. Квешав васассдасса лълъикIай ясго лълъикIила. kwe^aw wasaSdaSa :ijay yasgo :ijila. 117. Квешав гьудул гьавуге, лълъикIав тушман гьавуге. kwe^aw hudul hawuge, :ujaw tu^man hawuge. 118. Квешав россасс чIчIужу щакдарулилан абулеб, квешай чIчIужуялълъ росс щакдарулилан абулеб. (Росс щакдарулилан – чIчIужу, жив хIакъдарулилан – росс). kwe^aw roSaS Zu$u &akdarulilan abuleb, kwe^ay Zu$uya: roS &akdarulilan abuleb. (roS &akdarulilan - Zu$u, $iw \aqdarulilan - roS). 119. Квешав чи бусен борлIун вилълъизегIан чIаго ххутIулевила. kwe^aw xi busen bor/un wi:i#efan zago {uTulewila. 120. Квешав чи лъаларо, чараб гьой лъаларо. kwe^aw xi ;alaro, xarab hoy ;alaro. 121. Квешав чи нухдаги данде ккогеги. kwe^aw xi nu[dagi dande Kogegi. 122. Квешав чи – рагIуе, хвараб чIорто – нацIцIие. kwe^aw xi - rafuye, [warab zorto - na~iye. 123. Квешав чиясс рагIул магIна квешаб рахъалде цIцIалеб, лълъикIав чиясс лълъикIаб рахъалде цIцIалеб. kwe^aw xiyaS raful mafna kwe^ab ra]alde ~aleb, :ijaw xiyaS :ijab ra]alde ~aleb. 124. Квешав чияссда битIарабщинаб жо тIекъаблъун бихьулеб. kwe^aw xiyaSda biTarab&inab $o Teqab;un bi%uleb. 125. Квешав чияссда гьардейги гьорода бадибе кIурщиги – цого жо. kwe^aw xiyaSda hardeygi horoda badibe jur&igi - cogo $o. 126. Квешав чияссе лълъикIаб бицинегIан, лълъикIав чияссе наку чIвай лълъикIаб. kwe^aw xiyaSe :ijab bicinefan, :ijaw xiyaSe naku zway :ijab. 127. Квешав чияссе хIелиги, хIамие икрам гьабиги – цого жо. kwe^aw xiyaSe \eligi, \amiye ikram habigi - cogo $o. 128. Квешав чияссул баракат гьечIолъи ралъдалI бугеб ччугIиеги щолебила. kwe^aw xiyaSul barakat hezo;i ra;da/ bugeb Xufiyegi &olebila. 129. Квешавги лълъикIавги цого къаникьила лъолев. kwe^awgi :ijawgi cogo qanipila ;olew. 130. Квешавгун данделъани, квешлъаби тIагIунаро. kwe^awgun dande;ani, kwe^;abi Tafunaro. 131. Квешай лълъадиялда данде чIварав чи – квешаб бакIалдасса хъабарча бихъарав чи. kwe^ay :adiyalda dande zwaraw xi - kwe^ab bajaldaSa ]abarxa bi]araw xi. 132. Квешай чIчIужуялълъ росс хер гьавула, квешал лъималаз кIиялго хер гьарула. kwe^ay Zu$uya: roS [er hawula, kwe^al ;imala# jiyalgo [er harula. 133. Квешал чагIи чIвазе кколилан абидал, бищунго квешасс хханжар къватIибе цIцIарабила. kwe^al xafi zwa#e Kolilan abidal, bi&ungo kwe^aS {an$ar qwaTibe ~arabila. 134. Квешалги лълъикIлъула, лълъикIалин тани, лълъикIалги квешлъула, квешаб цIцIар чIвани. kwe^algi :ij;ula, :ijalin tani, :ijalgi kwe^;ula, kwe^ab ~ar zwani. 135. Квешалълъе мутIигIассда хIакъаб жо бичIчIуларо. kwe^a:e muTifaSda \aqab $o biZularo. 136. Квешасс эбел-инссул ирсалълъул бицуна, лълъикIасс гьезул гIаданлъиялълъул бицуна. kwe^aS ebel-inSul irasa:ul bicuna, :ijaS he#ul fadan;iya:ul bicuna. 137. Квешассе вагIза гьабе калам берцинаб бицун, лълъикIлъиялда тIовитIе битIараб нухги малълъун. kwe^aSe waf#a habe kalam bercinab bicun, :ij;iyalda TowiTe biTarab nu[gi ma:un. 138. Квешассулгун гьудуллъиялдасса лълъикIассулгун дагIба-рагIиго лълъикIила. kwe^aSulgun hudul;iyaldaSa :ijaSulgun dafba-rafigo :ijila. 139. Квешлъи гьабурассул квешлъиги – жиндиего, лълъикIлъи гьабурассул лълъикIлъиги – жиндиего. kwe^;i haburaSul kwe^;igi - $indiyego, :ij;i haburaSul :ij;igi - $indiyego. 140. Квешлъи гьабуниги – дуего, лълъикIлъи гьабуниги – дуего. kwe^;i habunigi - duyego, :ij;i habunigi - duyego. 141. Квешлъиги лълъикIлъиги цого рекIелIила букIунеб. kwe^;igi :ij;igi cogo reje/ila bujuneb. 142. Квешлъиялда ххадуб лълъикIлъиги, лълъикIлъиялда ххадуб квешлъиги камуларебила. kwe^;iyalda {adub :ij;igi, :ij;iyalda {adub kwe^;igi kamularebila. 143. Квешлъиялълъ лълъикIлъи гьабуларо, гважуцца кьегIер гьабуларо. kwe^;iya: :ij;i habularo, gwa$uCa pefer habularo. 144. Квине кIолареб бечелъиялдассаги цIунаги, россассда кьили лъурай лълъадиялдассаги цIунаги. kwine jolareb bexe;iyaldaSagi `unagi, roSaSda pili ;uray :adiyaldaSagi `unagi. 145. КвинчIеб жоялълъул баркала букIунареб. kwinzeb $oya:ul barkala bujunareb. 146. КвинчIониги гьан кьарияб лълъикI, кьечIониги мадугьал бечедав лълъикI. kwinzonigi han pariyab :ij, pezonigi maduhal bexedaw :ij. 147. КенчIероялълъ цIа бакун, цIецца мун ххинлъиларо. kezeroya: `a bakun, `eCa mun {in;ilaro. 148. Кепкил къимат гьабуларесс гъурщилги гьабулареб. ke_kil qimat habulareS vur&ilgi habulareb. 149. Кето гьечIеб бакIалда гIункIкIги – бахIарчи, цIцIум гьечIеб бакIалда чудукги – бахIарчи. keto hezeb bajalda funJgi - ba\arxi, ~um hezeb bajalda xudukgi - ba\arxi. 150. Кето гьечIеб гьороб хханлъи кIудагIонкIкIоцца гьабула. keto hezeb horob {an;i judafonJoCa habula. 151. Кето рихаразда гIункIкIаз къвал балеб. keto ri[ara#da funJa# qwal baleb. 152. Кето ругьун гьабуге цIцIогьодизе, цIцIуял жал ругьун гьаруге гьерссал рицине. keto ruhun habuge ~ohodi#e, ~uyal $al ruhun haruge herSal ricine. 153. Кето хIалакъассеги, хIама кьарияссеги яс кьоге. keto \alaqaSegi, \ama pariyaSegi yas poge. 154. КечI берцинлъизе – бакъан, риба хIалаллъизе – хIила. kez bercin;i#e - baqan, riba \alal;i#e - \ila. 155. Кибалиго аздагьо къинлъун рагIулила. kibaligo a#daho qin;un rafulila. 156. Кибе аниги, хIамие – хIалтIи, хIамибокьове аниги, нуцалчияссе – бертин. kibe anigi, \amiye - \alTi, \amibopowe anigi, nucalxiyaSe - bertin. 157. Кибе гъугъарабги – Гъуниб магIарде. kibe vuvarabgi - vunib mafarde. 158. Кибе ун букIараб гьитIинаб? КIудияб балагьизейищ? kibe un bujarab hiTinab? judiyab nalahi#eyi&? 159. Кици буго «ГьитIинаб жо кIодо гьабуни, кIудияб нахъа цула» абураб кициялълъул цогидаб абулеб куц. Малълъулеб буго, гьитIинаб жоги кIодо гьабун, кIудиял балагьал тIаде цIцIагеян. kici bugo «hiTinab $o jodo habuni, judiyab na]a cula» aburab kiciya:ul cogidab abuleb kuc. ma:uleb bugo, hiTinab $ogi jodo habun, judiyal balahal Tade ~ageyan. 160. Кибе цер аниги – ххадуб рачIчI, киве ххан аниги – ххадуб нагIана. kibe cer anigi - {adub raZ, kiwe {an anigi - {adub nafana. 161. Киве аниги – ххадув, хабалIеги – цадахъ. kiwe anigi - {aduw, [aba/egi - cada]. 162. КигIан бечедав вугониги, муруват гьечIев чи мискинчияссдасса гIодовегIанав. kifan bexedaw wugonigi, muruwat hezew xi miskinxiyaSdaSa fodowefanaw. 163. КигIан битIарабниги, мунго дуццаго веццуге. kifan biTarabnigi, mungo duCago weCuge. 164. КигIан гIадалавниги, гIебеде нух бокьила, кигIанго гьагавниги, гьакил шагьра бокьила. kifan fadalawnigi, febede nu[ bopila, kifango hagawnigi, hakil ^ahra bopila. 165. КигIан гIемераб цIцIад баниги, цIцIвакараб тIалда ххер бижуларо. kifan femerab ~ad banigi, ~wakarab Talda {er bi$ularo. 166. КигIан жиб битIаниги, жиндир каратI битIуларилан абулебила борхьиццаги. kifan $ib biTanigi, $indir karaT biTularilan abulebila bor%iCagi. 167. Борхьиде гIунтIизабулеб гьаб кици хIалтIизабула цIакъго ритIунилан гьарурал хIалтIаби данде рилълъинчIеб, ялъуни, витIун живгоги вукIаго, жиндир иш мекъсса рикIкIараб меххалълъ. bor%ide funTi#abuleb hab kici \alTi#abula `aqgo riTunilan harural \alTabi dande ri:inzeb, ya;uni, wiTun $iwgogi wujago, $indir i^ meqSa riJarab me{a:. 168. КигIан къойилахха пакъир бацIида бихьун батилеб, азарго гIиялълъажоялда гьоркьоб чохIоцца хвараб дир чахъу балагьулаго. kifan qoyila{a _aqir ba`ida bi%un batileb, a#argo fiya:a$oyalda horpob xo\oCa [warab dir xa]u balahulago. Ххунхахъ вукIанила Суракъатилан цIцIар бугев цIакъ кIал пасихIав, аваданав мискинчи. Гьединлъидал ххунздерил нуцал ГIалихъиличицца гьев жиндиего рекIелгъеялълъе ххабар-кIалалълъе ахIулаанила. {un#a] wujanila suraqatilan ~ar bugew `aq jal _asi\aw, awadanaw miskinxi. hedin;idal {un#deril nucal fali]ilixiCa hew $indiyego rejelveya:e {abar-jala:e a\ulaanila. ГIалихъилич цIакъ гIи-боцIцIи гIемерав чи вукIанила. fali]ilix `aq fi-bo~i femeraw xi wujanila. Ххасалихъе гIи хъутаналде гочунеб заман букIанила. Суракъатицца ГIалихъиличида гьаранила гьессул гIияда цадахъ жиндир цо чахъуги бачине бегьиларищилан. Валлагьин, дур цо чахъдацца кванан жиндир хъутанги лIугIиларин, гьелълъие гIоло цоги вехьги тезе ккеларин, бачинилан абунила ГIалихъиличицца. {asali]e fi ]utanalde goxuneb #aman bujanila. suraqatiCa fali]ilixida haranila heSul fiyada cada] $indir co xa]ugi baxine behilari&ilan. walahin, dur co xa]daCa kwanan $indir ]utangi /ufilarin, he:iye folo cogi we%gi te#e Kelarin, baxinilan abunila fali]ilixiCa. Щванила тIаде ихги, гочанила магIарухъе ГIалихъиличил гIиги. Воххун вукIанила Суракъат, хъутаналдасса кьаралъун жиндир чахъуги бачIун батилин, гьелда ххадуб кIигониги кьегIерги батилилан. &wanila Tade i[gi, goxanila mafaru]e fali]ilixil figi. wo{un wujanila suraqat, ]utanaldaSa para;un $indir xa]ugi bazun batilin, helda {adub jigonigi pefergi batililan. Щванилахха ав жиндирго боцIцIи рокъобе бачине. Валагьин, дир гьудул, дур чахъу бацIицца чIван батанилан зигара банила нуцалицца Суракъатида. &wanila{a aw $indirgo bo~i roqobe baxine. walahin, dir hudul, dur xa]u ba`iCa zwan batanilan #igara banila nucaliCa suraqatida. - Гьеб пакъир бацIида дир кутакалда ракI гурхIулеб буго! – ян абунила мискинчиясс. - heb _aqir ba`ida dir kutakalda raj gur\uleb bugo! - yan abunila miskinxiyaS. - ЧIвараб чахъдада гурхIичIого, чахъуги чIван, кепалда бугеб бацIидагIаги щай дур ракI гурхIулеб? – ан гIажаиблъи гьабунила нуцалицца. - zwarab xa]dada gur\izogo, xa]ugi zwan, ke_alda bugeb ba`idafagi &ay dur raj gur\uleb? - an fa$aib;i habunila nucaliCa. - КигIан къохха гьеб пакъир бацIида бихьун батилеб, азарго гIиялълъажоялда гьоркьоб чохIоцца хвараб дир чахъу балагьулаго! – ян жаваб кьунила Суракъатицца. - kifan qo{a heb _aqir ba`ida bi%un batileb, a#argo fiya:a$oyalda horpob xo\oCa [warab dir xa]u balahulago! - yan $awab punila suraqatiCa. 169. КигIан кьогIабги битIараб, кигIан гьуинабги гьерессиялдасса лълъикIабила. kifan pofabgi biTarab, kifan huinabgi hereSiyaldaSa :ijabila. 170. КигIан лълъикI хьихьаниги, бацI рохьобе балагьулебила. kifan :ij %i%anigi, ba` ro%obe balahulebila. 171. КигIан лIулIаниги, тIухьиялълъ къотIулареб. kifan /u/anigi, Tu%iya: qoTularew. 172. КигIан мимиданиги, мун дир кето гуро, кIудияб алхIам цIцIаланиги, дицца дуе жо реххуларо. kifan mimidanigi, mun dir keto guro, judiyab al\am ~alanigi, diCa duye re{ularo. 173. КигIан рекIараб букIаниги, ххвалчацца жиндирго лъел къотIулареб. kifan rejarab bujanigi, {walxaCa $indirgo ;el qoTulareb. 174. КигIан рекIараб гьечIониги, нус буго нус, кигIан лебалав гьечIониги, бихьинчи вуго бихьинчи. kifan rejarab hezonigi, nus bugo nuc, kifan lebalaw hezonigi, bi%inxi wugo bi%inxi. 175. КигIан роцIцIараб къоялълъги зобгъугъанцIцIад рокьоялълъ рикIкIад букIунаребила. kifan ro~arab qoya:gi #obvuvan~ad ropoya: riJad bujunarebila. 176. КигIан ххалатаб букIаниги, цо расул квар лIугьунаребила. kifan {alatab bujanigi, co rasul kwar /uhunarebila. 177. Кидаго бахIараб жо ракIила, кидаго хIасратаб жо хьулила. kidago ba\arab $o rajila, kidago \asratab $o %ulila. 178. Кидаго вехь – гванзаб чодул бетIергьан. kidago we% - gwan#ab xodul beTerhan. 179. Кидаго гуребила ролIул чед букIунеб, цо-цониги тIохьтIоххинкIги кваназе кколебила. kidago gurebila ro/ul xed bujuneb, co-conigi To%To{injgi kwana#e Kolebila. 180. Кидаго гьетIараб гъветI гьанже цIцIан битIиларо. kidago heTarab vweT han$e ~an biTilaro. 181. Кидаго дагIбадулев гIабдал гурони вукIунарев. kidago dafbadulew fabdal guroni wujunarew. 182. Кидаго лIугIулареб жо – как, кидаго гIорцIцIулареб жо – ралъад. kidago /ufulareb $o - kak, kidago for~ulareb $o - ra;ad. 183. Кидаго хвеларел гIадин дуниялги гьабейила, метерго хвелел гIадин динги гьабейила. kidago [welarel fadin duniyal habeyila, metergo [welel fadin dingi habeyila. 184. Кидаго хIакимлъун чи ххутIуларев, кидаго роцIцIухъе зоб букIунареб. kidago \akim;un xi {uTularew, kidago ro~u]e #ob bujunareb. 185. Кидаго хӏалимлъиги хӏалихьалъийила. kidago \alim;igi \ali%a;iyila. 186. Кидаго ццебе лъураб цIцIел гIадлъулареб, цо нухалълъ ццебе лъуни, чахъдал гIадлъулеб. kidago Cebe ;urab ~el fad;ulareb, co nu[a: Cebe ;uni, xa]dal fad;uleb. 187. Кидаго чияда ваччунги вукIунге, цо-цониги дандеявги вачче. kidago xiyada waXungi wujunge, co-conigi dandeyawgi waXe. 188. Кидадай дун херлъила, бахIараб меххалълъ диццаго гьарурал гьунарал рицине. kidaday dun [er;ila, ba\arab me{a: diCago harural hunaral ricine. 189. Кидадай лъимал гIелаян эбел-эмен, кидадай гьел хвелаян лъимал. kididay ;imal felayan ebel-emen, kidaday hel [welayan ;imal. 190. Килщида рекъараб баргъич, рекIеда рекъарав вокьулев. kil&ida reqarab barvix, rejeda reqaraw wopulew. 191. Кин бицаниги, гьересси бицалълъ рекъоларебила. kin bicanigi, hereSi bica: reqolarebila. – Кин лъараб, кIудияв чи? kin ;arab, judiyaw xi? – Бихьун лъана, дир вас, бихьун лъана! bi%un ;ana, dir was, bi%un ;ana! 192. Кинаб бугониги, ВатIан буго ВатIан. kinab bugonigi, waTan bugo waTan. 193. Кинаб букIаниги щибин батIияб жойилан, эбелалълъ лъималазе «кьилиххинкIал» гьаруралила. kinab bujanigi &ibin baTiyab $oyilan, ebela: ;imala#e «pili{injal» haruralila. 194. Кинабго балагьалълъул бетIер – гьекъел, кинабго лълъикIлъиялълъул бетIер – рекъел. kinabgo balaha:ul beTer - heqel, kinabgo :ij;iya:ul beTer - reqel. 195. Кинабго балагьалълъул бетIер – гIакълу гьечIолъи, гIакълу гьечIолъиялълъул бетIер – гIамал кIодолъи. kinabgo balaha:ul beTer - faqlu hezo;i, faqlu hezo;iya:ul beTer - famal jodo;i. 196. Кинабго бацIилги – цого гIамал, кинавго хханассулги – цого гIамал. kinabgo ba`ilgi - cogo famal, kinawgo {anaSulgi - cogo famal. 197. Кинабго гъотIода пихъ бижуларо, кинавго чияссул чи лIугьунаро. kinabgo voToda _i] bi$ularo, kinawgo xiyaSul xi /uhunaro. 198. Кинабго гъотIода чIор кIанцIулареб, кинабго чIоралълъул гъветI лIугьунареб. kinabgo voToda zor jan`ulareb, kinabgo zora:ul vweT /uhunareb. 199. Кинабго гIайиб цого чияссда букIунареб, дагьабниги дандеяссдаги батизе бегьулеб. kinabgo fayib cogo xiyaSda bujunareb, dahabnigi dandeyaSdagi bati#e behuleb. 200. Кинабго жо дурго натIицца борцунге. kinabgo $o durgo naTiCa borcunge. 201. Кинабго жо, цохIо Аллагьассда гурони, лъалареб. kinabgo $o, co\o allahaSda guroni, ;alareb. 202. Кинабго нухда ккола, бищунго квешаб жо буго жагьиллъиги чIухIиги. kinabgo nu[da Kola, bi&ungo kwe^ab $o bugo $ahil;igi zu\igi. 203. Кинабго оцода гуребила рекIелI ракьа букIунеб. kinabgo ocoda gurebila reje/ rapa bujuneb. 204. Кинабго рахъ рекъарав гьудул валагьизе лIугьани, гьудулго гьечIого ххутIизе бегьулевила. kinabgo ra] reqaraw hudul walahi#e /uhani, hudulgo hezogo {uTi#e behulewila. 205. Кинабго хъабидасса жаниб бугеб жоялълъул махI букIунеб. kinabgo ]abidaSa $anib bugeb $oya:ul ma\ bujuneb. 206. Кинабго чол гуреб юргъа букIунеб, кинабго гьой гуреб чанил букIунеб. kinabgo xol gureb yurva bujuneb, kinabgo hoy gureb xanil bujuneb. 207. Кинабгоги балагь – мацIцIалълъул, кидагоги балагь – мацIцIалълъул. kinabgogi balah - ma~a:ul, kidagogi balah - ma~a:ul. 208. Кинабгоги лъалев – лъараб жоги гьечIев, кинабгоги бихьарав – бихьараб жоги гьечIев. kinabgogi ;alew - ;arab $ogi hezew, kinabgogi bi%araw - bi%arab $ogi hezew. 209. Кинавго имам Шамил - имам гIадав вахъинчIев, кинавго бахIарчи ХIажимурад гIадав лIугьинчIев. kinawgo imam ^amil - imam fadaw wa]inzew, kinawgo ba\arxi \a$imurad fadaw /uhinzew. 210. Кинавго чи цого кIалалълъ кIалъала, бицунебги гьабулебги батIи-батIияб букIуна. kinawgo xi cogo jala: ja;ala, bicunebgi habulebgi baTi-baTiyab bujuna. 211. Кинавго чияссе жаваб кьезе кколареб. kinawgo xiyaSe $awab pe#e Kolareb. 212. Киназго гьикъулила лълъим гьекъеларищан, лълъиццаниги гьикъуларила квен кваналарищан. kina#go hiqulila :im heqelari&an, :iCanigi hiqularila kwen kwanalari&an. 213. Киназго пунани, гьури лIугьуна. kina$go _unani, huri /uhuna. 214. Киназдего бачIараб жо – байрам, цояссде бачIараб жо – балагь. kina#dego bazarab $o - bayram, coyaSde bazarab $o - balah. 215. Киналго беццалълъуб – берал къанще, киналго рекъалълъуб – мунги рекълълъе. kinalgo beCa:ub - beral qan&e, kinalgo reqa:ub - mungi req:e. 216. Киналго гIадамал гурелила лълъикIал рукIунел, цо-цоял гьабиги рукIунел, цо-цоял гьвел рачIчIалги рукIунел. kinalgo fadamal gurelila :ijal rujunel, co-coyal habigi rujunel, co-coyal hwel raZalgi rujunel. 217. Киналго гIайибазе гIила сониссеб буго. kinalgo fayiba#e fila soniSeb bugo. 218. Киналго гIамалал данде ккун гурейила чIчIужу ячуней, цо берцин бихьараб гIамалалълъухъ рокьи ккунила ячуней. kinalgo famalal dande Kun gureyila Zu$u yaxuney, co bercin bi%arab famala:u] ropi Kunila yaxuney. 219. Киналго мурадал тIуран, дове щивниги инчIевила. kinalgo muradal Turan, dowe &iwnigi inzewila. 220. Киналго тIад рекъолеб къанун букIунаребила. kinalgo Tad reqoleb qanun bujunarebila. 221. Киналго херлъула, лъималаз малълъ босичIел ххеххго херлъула. kinalgo [er;ula, ;imala# ma: bosizel {e{go [er;ula. 222. Киналдего квер ххапарассе цонигияб щолареб. kinaldego kwer {a_araSe conigiyab &olareb. 223. Кири бокьанани, хIежалде а. kiri bopanani, \e$alde a. 224. Кисса катие бахъухъ? kiSa katiye ba]u]? 225. Кисса щварабали лъалареб боцIцIи, кибе арабали лъачIого тIагIунеб. kiSa &warabali ;alareb bo~i, kibe arabali ;azogo Tafuneb. 226. Кисса-кибего бакъ радал баккула. kiSa-kibego baq radal baKula. 227. Киссан гирарабги гьорчо – кIкIалахъе. kiSan girarabgi horxo - Jala]e. 228. Кисинибе нух гьечIев, гьекъолеб жоялълъул гурони мацIцI лъаларев. kisinibe nu] hezew, heqoleb $oya:ul guroni ma~ ;alarew. 229. Кици бокьаги, рокьи цIцIикIкIаги. kici bopagi, ropi ~iJagi. 230. Кици гIемерассул гIакълу дурусаб, дунял бихьарассул хьвади дурусаб. kici femeraSul faqlu durusab, dunyal bi%araSul %wadi durusab. 231. Кици лъалессул – лъай камилаб, квер устарассул – иш камилаб. kici ;aleSul - ;ay kamilab, kwer ustaraSul - i^ kamilab. 232. Кици ххирияссул ххабар гьуинаб, гьобол ххирияссул ххинкI гьуинаб. kici {iriyaSul {abar huinab, hobol {iriyaSul {inj huinab. 233. Кодоб кватIани, болъонил цIцIоко цIцIеллъун бихьулебила. kodob kwaTani, bo;onil ~oko ~el;un bi%ulebila. 234. Кодоб кквезе гIоркь гуреб, гIодоб лъезе тIину гуреб. kodob Kwe#e forp gureb, fodob ;e#e Tinu gureb. 235. Кодобе кьураб рукIкIен тIад гьабун босараб маргъалалдасса лълъикIаб (Кодобе щваралда жо релълъунареб). kodobe purab ruJen Tad habun bosarab marvalaldaSa :ijab (kodobe &waralda $o re:unareb). 236. Колол – гьой цIцIодораб, росдал – чи цIцIодорав. kolol - hoy ~odorab, rosdal - xi ~odoraw. 237. Колол гьойда хIапизе лъалареб. kolol hoyda \a_i#e ;alareb. 238. Кодосса инчIого къимат лъалареб бахIарлъи, тIаде щвечIого квешлъи лъалареб херлъи. kodoSa inzogo qimat ;alareb ba\ar;i, Tade &wezogo kwe^;i ;alareb [er;i. 239. Корохъ гьабизе – яс, гьабихъе йитIизе – нус. koro] habi#e - yas, habi]e yiTi#e - nus. 240. КочIохъан – берталълъе, дибир – къулгьудалълъе. kozo]an - berta:e, dibie - qulhuda:e. 241. Куй белъунеб хьагиниб оц гьунареб. kuy be;uneb %aginib oc hunareb. 242. Куй хъун кIалъазаюрай, оц хъун юцIцIинаюрай. kuy ]un ja;a#ayuray, oc ]un yu~inayuray. 243. Кумек гьабе хIажатассе, хIурмат цIуне хварассулги. kumek habe \a$ataSe, \urmat `une [waraSulgi. 244. Кумек гьабизе кIолеб гьечIони, заралгIаги гьабичIого тейила. kumek habi#e joleb hezoni, #aralfagi habizogo teyila. 245. Кун ххутIараб катие реххуларев, бацIида ццебе куй толев. kun {uTarab katiye re{ularew, ba`ida Cebe kuy tolew. 246. Куракул гъветI лъималазе чIчIейила, генугъветI лъималазул лъималазе чIчIейила. kurakul vweT ;imala#e Zeyila, genuvweT ;imala#ul ;imala#e Zeyila. 247. Куркьбал гьечIеб хIинчIчI гуребила, ВатIан гьечIев чи гуревила. kurpbal hezeb \inZ gurebila, waTan hezew xi gurewila. 248. Куркьбал рижани, хIинчIчI бусада чIчIолареб. kurpbal ri$ani, \inZ busada Zolareb. 249. Кусил гIакълу къаденахъе биххулеб. (Кусилгун даран къаденахъе гьабе). kusil faqlu qadena]e bi{uleb (kusilgun daran qadena]e habe). 250. Кутул гьечIеб гьорор гIункIкIал расандулел. kutul hezeb horor funJal rasandulel. 251. Куц берцинай йигилан ясалълъе къимат кьоге, гIамал берцинай яче, намус цIунарай яче. kuc bercinay yigilan yasa:e qimat poge, famal bercinay, namus `unaray yaxe. 252. Куц гьоцIцIо гьабулессул гьечIо, гьоцIцIо чIчIикIулессул буго. kuc ho~o habuleSul hezo, ho~o ZijuleSul bugo. 253. Куц квешаб жоялълъул гIамалги квешаб. kuc kwe^ab $oya:ul famalgi kwe^ab. 254. Куцалда божуге, гIамалалда божа. kucalda bo$uge, famalalda bo$a. 255. Куцалда релълъарабила гIамалги букIунеб. kucalda re:arabila famalgi bujuneb. 256. Куцанщинав чияссул чи лIугьунарев, квегъанщинаб чодул чу лIугьунареб. kucan&inaw xiyaSul xi /uhunarew, kwevan&inab xodul xu /uhunareb. 257. КучIдузулI реххсарай, ххарбалI бицарай. kujdu#u/ re{saray, {arba/ bicaray.

  • z | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Чч X ЧчугIа кколессул роц лълъелIила букIине кколеб. Ччузе бокьулев, ххузе бокьуларев вукIунарев.

  • tltl | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Цц C Ццебе бекьарассул хур кIудияб, ххадуб бекьарассул ссан кIудияб. Ццебе кIал биххарав кIалъан къола. Ццебе лъураб кванида щибго кIалъай гьабуге. Ццебе рукIкIен бахъун, ххадуб кун бахъун. Ццебе цIа гьечIони, нахъа рахъу кколареб. Ццебе цIакъаб чиярлъаги, нахъа цIакъаб нилIерлъаги. Ццебессеб ццебе гьабе, ххадуссеб ххадуб гьабе. Ццебеккунго ургъарав нахъа воххула, ригьда нахърател гьабичIев нахъа пашманлъула. ЦцебетIамалълъе тIил бигъараб, витIунчияссе росу хвараб. Ццебехъанлъун гъеду тани, рещтIен рощногохIда гьабулебила. Ццеве валагьун, вилълъа, нахъе валагьун, гьури биччай. Ццеве вугессул хIетIе хъущтIани, нахъияв цIцIодорлъула. Ццеве къвакIуге, нахъа чучуге. Ццеве кIанцIани, гIадалI щола, нахъа чIчIани, гъванщилI щола. Ццеве хварав мискинчи ххадув вукъула, ххадув хварав бечедав ццеве вукъула. Ццевесса инчIого, чияссул къимат лъаларо. Ццевехъан живго ццеве унев чи гуревила, цогидалги цадахъ рачунев чийила. Ццее – Ххалун, ххадув – ГIабас. Ццидадассан – ццин, цIадудассан – цIа. Ццидал къали гьекъечIесс бакъул кеп босуларо. Ццидал къали гьекъечIесс инссул росу кколаро. Ццидалав чи жанисса махIцаравила вукIунев. Ццидалассе роххел гьечIеб, баххилассе гьудул гьечIев. Ццидацца гIакълу инабулеб, ургъалицца квен тезабулеб. Ццидацца лълъикIаб жо гьабуларебила. Ццин бахъарав воххичIо, ххеххлъарав разилъичIо. Ццин бахъарав чияссда канлъи бихьулареб. Ццин бахъарай якьад цIарагI чуризе йиччаге. Ццин бахъиналълъ гIакълу унеб, гIамал кIодолъиялълъ къадру холеб. Ццин бахъун реххараб гьан гьойццаги кваналареб. Ццин бугеб цIцIодораб жо, къурассде гурони бахъунареб. Ццин къулчIчIе, къурассда тIасса лIугьа. Ццин къулчIчIи буго бахIарчилъиялълъул гIаламат.

  • Пачалихъал

    Пачалихъал магIарул мацIцIалда 193 пачалихъ ва пачалихъазул ватIанцоял (Цолъарал Миллатазул ГIуцIцIи) 193 _axali]gi _axali]a:ul waTancoyalgi (co;aral milata#ul fu~i) ВатIанцоял - ...илIел, миллатал - ...ал Масала, Дочч илI пачалихъалда ругел щинал гIадамал - ватIанцоял доччилIел кколел руго. Дочч илI ругел щинал миллатал доччал, туркал, гIарабал, гIурусал ... кколел руго. Австралия - ОзилI, озилIел o#i/, o#i/el - ئۈزێڶ، ئۈزێڶېل Австрия — ОстерилI, остерилIел osteri/, osteri/el — ئۈستېرێڶ، ئۈتېرێڶېل Азербайджан — КъажарилI, къажарилIел qa$aru/, qa$ari/el — قاجارۇڶ، قاجارێڶېل Албания — ИшкипилI, ишкипилIел i^ki_i/, i^ki_i/el — ئێشكێفێڶ، ئێشكێفێڶېل Алжир — ЖазирилI, жазирилIел $a#iri/, $a#iri/el — جازێرێڶ، جازێرێڶېل Англия — ИнгилилI, ингилилIел ingili/, ingili/el — ئێنڬێلێڶ، ئێنڬێلێڶېل Ангола — АнголилI, анголилIел angoli/, angoli/el — انڬۈلێڶ، انڬۈلێڶېل Андорра — АндорилI, андорилIел andori/, andori/el — اندۈرێڶ، اندۈرێڶېل Антигуа и Барбуда — АнтигилI, антигилIел antigi/, antigi/el — انتێڬێڶ، انتێڬێڶېل Аргентина, аргентинцы — АргинтинилI, аргинтинилIел argintini/, argintini/el — ارڬێنتێنێڶ، ارڬێنتێنێڶېل Армения — ЦIцIамухъ, цIцIамухъилIел ~amu], ~amu]i/el — ڞامۇڅ، ڞامۇڅێڶېل Афганистан — АвгъанилI, авгъанилIел awvani/, awvani/el — اوغانێڶ، اوغانێڶېل Багамы — Багам илI , багамилIел bagam i/ , bagami/el — باڬام ێڶ ، باڬامێڶېل Бангладеш — Бангал илI , бангалилIел bangal i/ , bangani/el — بانڬال ێڶ ، بانڬالێڶېل Барбадос — Барбадос илI , барбадосилIел barbados i/ , barbadosi/el — باربادۈس ێڶ ، باربادۈسێڶېل Бахрейн — БахIран илI , бахIранилIел ba\ran i/ , ba\rani/el — باحران ێڶ ، باحرانێڶېل Белоруссия — ХъахIрусс илI , хъахIруссилIел ]a\rus i/ , ]a\rusi/el — څاحرۇص ێڶ ، څاحرۇصێڶېل Белиз — Билиз илI , билизилIел bili# i/ , bili#i/el — بێلێز ێڶ ، بێلێزێڶېل Бельгия — Белг илI , белгилIел belgik i/ , belgiki/el — بېلڬ ێڶ ، بېلڬێڶېل Бенин — Бинин илI , бининилIел binin i/ , binini/el — بێنێن ێڶ ، بێنێنێڶېل Болгария — Булгур илI , булгурилIел bulgur i/ , bulguri/el — بۇلڬۇر ێڶ ، بۇلڬۇرێڶېل Боливия — Боливар илI , боливарилIел boliwar i/ , boliwari/el — بۈلێوار ێڶ ، بۈلێوارێڶېل Босния и Герцеговина — Башнак илI , башнакилIел ba^nak i/ , ba^naki/el — باشناك ێڶ ، باشناكێڶېل Ботсвана — Ботосван илI , ботосванилIел botoSwan i/ , botoSwani/el — بۈتۈسوان ێڶ ، بۈتۈسوانێڶېل Бразилия — Баразил илI , баразилилIел bara#il i/ , bara#ili/el — بارازێل ێڶ ، بارازێلێڶېل Бруней — Бурун илI , бурунилIел burun i/ , buruni/el — بۇرۇن ێڶ ، بۇرۇنێڶېل Буркина-Фасо — Буркин илI , буркинилIел burkin i/ , burkini/el — بۇركێن ێڶ ، بۇركێنێڶېل Бурунди — Бур у нд илI , бурундилIел burund i/ , burundi/el — بۇرۇند ێڶ ، بۇرۇندێڶېل Бутан — Бутан илI , бутанилIел butan i/ , butani/el — بۇتان ێڶ ، بۇتانێڶېل Вануату — Ванут илI , ванутилIел wanut i/ , wanuti/el — وانۇت ێڶ ، وانۇتێڶېل Великобритания — Биритан илI , биританилIел biritan i/ , biritani/el — بێرێتان ێڶ ،بێرێتانێڶېل Венгрия — Вунгур илI , вунгурилIел wungur i/ , wunguri/el — وۇنڬۇر ێڶ ، وۇنڬۇرێڶېل Венесуэла — Винисул илI , винисулилIел winisul i/ , winisuli/el — وێنێسۇل ێڶ ، وێنێسۇلێڶېل Восточный Тимор — Бакъбаккул Тимир илI , тимирилIел baqbaKul timir i/ , timiri/el — باقباڭۇل تێمێر ێڶ ، تێمێرێڶېل Вьетнам — Вет илI , ветилIел wet i/ , weti/el — وېت ێڶ ، وېتێڶېل Габон — Габан илI , габанилIел gaban i/ , gabani/el — ڬابان ێڶ ، ڬابانێڶېل Гаити — Гаит илI , гаитилIел gait i/ , gaiti/el — ڬائێت ێڶ ڬائێتێڶېل Гайана — Гаян илI , гаянилIел gayan i/ , gayahi/el — ڬايان ێڶ ، ڬايانێڶېل Гамбия — Камбар илI , камбарилIел kambar i/ , kambari/el — كامبار ێڶ ، كامبارێڶېل Гана — Ган илI , ганилIел gan i/ , gani/el — ڬان ێڶ ، ڬانێڶېل Гватемала — Гватемал илI , гватемалилIел gwatemal i/ , gwatimali/el — ڬواتېمال ێڶ ، ڬواتېمالێڶېل Гвинея — Гвин илI , гвинилIел gwin i/ , gwini/el — ڬوێن ێڶ ، ڬوێنێڶېل Гвинея-Бисау — Гвинбис илI , гвинбисилIел gwinbis i/ , gwinbisi/el — ڬوێنبێس ێڶ ، ڬوێنبێسێڶېل Германия — Дочч илI , доччилIел doX i/ , doXi/el — دۈڿ ێڶ ، دۈڿێڶېل Гондурас — Гондурас илI , гондурасилIел gonduras i/ , gondurasi/el — ڬۈندۇراس ێڶ ، ڬۈندۇراسێڶېل Гренада — Геренад илI , геренадилIел gerenad i/ , gerenadi/el — ڬېرېناد ێڶ ، ڬېرېنادێڶېل Греция — Элин илI , элинилIел elin i/ , elini/el — ئېلێن ێڶ ، ئېلێنێڶېل Грузия (Сакартвело) — КIартIул илI , кIартIулилIел jarTwel i/ , jarTweli/el — گارطۇل ێڶ ، گارطۇلێڶېل Дания — Дан илI , данилIел dan i/ , dani/el — دان ێڶ ، دانێڶېل Джибути — Жибут илI , жибутилIел $ibut i/ , $ibuti/el — جێبۇت ێڶ ، جێبۇتێڶېل Доминика — Домик илI , домикилIел domik i/ , domiki/el — دۈمێك ێڶ ، دۈمێكێڶېل Доминиканская Респ. — Домкан илI , домканилIел domkan i/ , domkani/el — دۈمكان ێڶ ، دۈمكانێڶېل Египет — Миссир илI , миссирилIел miSir i/ , miSiri/el — مێصێر ێڶ ، مێصێرێڶېل Замбия — Замб илI , замбилIел #amb i/ , #ambi/el — زامب ێڶ ، زامبێڶېل Зимбабве — Зимбаб илI , зимбабилIел #imbab i/ , #imbabi/el — زێمباب ێڶ ، زێمبابێڶېل Израиль — Исрил илI , исрилилIел isril i/ , isrili/el — ئێسرێل ێڶ ، ئێسرێلێڶېل Индия (Бхарат) — Гьинд илI , гьиндилIел hind i/ , hindi/el هێند ێڶ ، هێندێڶېل (Багьарат илI , багьаратилIел baharat i/ , baharati/el) — (باهارات ێڶ ، باهاراتێڶېل) Индонезия — Гьиндунус илI , гьиндунусилIел hindunus i/ , hindunusi/el — هێندۇنۇس ێڶ ، هێندۇنۇسێڶېل Иордания — Урдун илI , урдунилIел urdun i/ , urduni/el — ئۇردۇن ێڶ ، ئۇردۇنێڶېل Ирак — ГIиракъ илI , гIиракъилIел firaq i/ , firaqi/el — عێراق ێڶ ، عێراقێڶېل Иран — ХIамшар илI , хIамшарилIел \am^ar i/ , \am^ari/el — حامشار ێڶ ، حامشارێڶېل Ирландия — Ир илI , ирилIел ir i/ , iri/el — ئێر ێڶ ، ئێرێڶېل Исландия — Ис илI , исилIел is i/ , isi/el — ئێس ێڶ ، ئێسێڶېل Испания — Испан илI , испанилIел is_an i/ , is_ani/el — ئێسفان ێڶ ، ئێسفانێڶېل Италия — Итал илI , италилIел ital i/ , itali/el — ئێتال ێڶ ، ئێتالێڶېل Йемен — Яман илI , яманилIел yaman i/ , yamani/el — يامان ێڶ ، يامانێڶېل Кабо-Верде — Кабавер илI , кабаверилIел kabawer i/ , kabaweri/el — كاباوېر ێڶ ، كاباوېرێڶېل Казахстан — Хъазахъ илI , хъазахъилIел ]a#a] i/ , ]a#a]i/el — څازاڅ ێڶ ، څازاڅێڶېل Камбоджа — Канбуч илI , канбучилIел kanbux i/ , kanbuXi/el — كانبۇچ ێڶ ، كانبۇچێڶېل Камерун — Камарун илI , камарунилIел kamarun i/ , kamaruni/el — كامارۇن ێڶ ، كامارێنێڶېل Канада — Канад илI , канадилIел kanad i/ , kanadi/el — كاناد ێڶ ، كانادێڶېل Катар — КъатIар илI , къатIарилIел qaTar i/ , qaTari/el — قاطار ێڶ ، قاطارێڶېل Кения — Кернег илI , кернегилIел kerneg i/ , kernegi/el — كېرنېڬ ێڶ ، كېرنېڬێڶېل Кипр — Къубрусс илI , къубруссилIел qubruS i/ , qubruSi/el — قۇبرۇص ێڶ ، قۇبرۇصێڶېل Киргизия — Хъиргъиз илI , хъиргъизилIел ]irvi# i/ , ]irvi#i/el — څێرغێز ێڶ ، څێرغێزێڶېل Кирибати — Кирбит илI , кирбитилIел kirbit i/ , kirbiti/el — كێربێت ێڶ ، كێربێتێڶېل КНР (Китай) — Хъитан илI , хъитанилIел ]itan i/ , ]itani/el — څێتان ێڶ ، څێتانێڶېل Колумбия — Колумб илI , колумбилIел kolumb i/ , kolumbi/el — كۈلۇمب ێڶ ، كۈلۇمبێڶېل Коморы — Къумур илI , къумурилIел qumur i/ , qumuri/el — قۇمۇر ێڶ ، قۇمۇرێڶېل Республика Конго — БакътIерхьул Конг илI , конгилIел baqTer%ul kong i/ , kongi/el — باقطېرڮۇل كۈنڬ ێڶ ، كۈنڬێڶېل Дем. Респ. Конго — Бакъбаккул Конг илI , конгилIел baqbaKul kong i/ , kongi/el — باقباڭۇل كۈنڬ ێڶ ، كۈنڬێڶېل КНДР — Чосон илI , чосонилIел xoson i/ , xosoni/el — چۈسۈن ێڶ ، چۈسۈنێڶېل Республика Корея — Хангуг илI , хангугилIел {angug i/ , {angugi/el — خانڬۇڬ ێڶ ، خانڬۇڬێڶېل Коста-Рика — Костар илI , костарилIел kostar i/ , kostari/el — كۈستار ێڶ ، كۈستارێڶېل Кот-д’Ивуар — Дивар илI , диварилIел diwar i/ , diwari/el — دێوار ێڶ ، دێوارێڶېل Куба — Куб илI , кубилIел kub i/ , kubi/el — كۇب ێڶ ، كۇبێڶېل Кувайт — Кувайт илI , кувайтилIел kuwayt i/ , kuwayti/el — كۇوايت ێڶ ، كۇوايتێڶېل Лаос — Лаос илI , лаосилIел laos i/ , laosi/el — لائۈس ێڶ ، لائۈسێڶېل Латвия — Лат илI , латилIел lat i/ , lati/el — لات ێڶ ، لاتێڶېل Лесото — Лисот илI , лисотилIел lisot i/ , lisoti/el — لێسۈت ێڶ ، لێسۈتێڶېل Либерия — Либир илI , либирилIел libir i/ , libiri/el — لێبێر ێڶ ، لێبێرێڶېل Ливан — Лабан илI , лабанилIел laban i/ , labani/el — لابان ێڶ ، لابانێڶېل Ливия — Либ илI , либилIел lib i/ , libi/el — لێب ێڶ ، لێبێڶېل Литва — Лит илI , литилIел lit i/ , liti/el — لێت ێڶ ، لێتێڶېل Лихтенштейн — Лихтен илI , лихтенилIел li{ten i/ , li{teni/el — لێختېن ێڶ ، لێختېنێڶېل Люксембург — Леццен илI , лецценилIел leCen i/ , leCeni/el — لېڛېن ێڶ ، لېڛېنێڶېل Маврикий — Маврик илI , маврикилIел mawrik i/ , mawriki/el — ماورێك ێڶ ، ماورێكێڶېل Мавритания — Мавгьар илI , мавгьарилIел mawhar i/ , mawhari/el — ماوهار ێڶ ، ماوهارێڶېل Мадагаскар — Малгас илI , малгасилIел malgas i/ , malgasi/el — مالڬاس ێڶ ، مالڬاسێڶېل Македония — Ускуп илI , ускупилIел usku_ i/ , usku_i/el — ئۇسكۇف ێڶ ، ئۇسكۇفێڶېل Малави — Малав илI , малавилIел malaw i/ , malawi/el — مالاو ێڶ ، مالاوێڶېل Малайзия — Малай илI , малайилIел malay i/ , malayi/el — مالاي ێڶ ، مالايێڶېل Мали — Мал илI , малилIел mal i/ , mali/el — مال ێڶ ، مالێڶېل Мальдивы — Малдив илI , малдивилIел maldiw i/ , maldiwi/el — مالدێو ێڶ ، مالدێوێڶېل Мальта — Малт илI , малтилIел malt i/ , malti/el — مالت ێڶ ، مالتێڶېل Марокко — Магъриб илI , магърибилIел mavrib i/ , mavribi/el — ماغرێب ێڶ ، ماغرێبێڶېل Маршалловы Острова — Мараш илI , марашилIел mara^ i/ , mara^i/el — ماراش ێڶ ، ماراشێڶېل Мексика — Мексик илI , мексикилIел meksik i/ , meksiki/el — مېكسێك ێڶ ، مېكسێكێڶېل Мозамбик — Мазамбик илI , мазамбикилIел ma#ambik i/ , ma#ambiki/el — مازامبێك ێڶ ، مازامبێكێڶېل Молдавия — Мулдан илI , мулданилIел muldan i/ , muldani/el — مۇلدان ێڶ ، مۇلدانێڶېل Монако — Манак илI , манакилIел manak i/ , manaki/el — ماناك ێڶ ، ماناكێڶېل Монголия — Мунгул илI , мунгулилIел mungul i/ , munguli/el — مۇنڬۇل ێڶ ، مۇنڬۇلێڶېل Мьянма — Миян илI , миянилIел miyan i/ , miyani/el — مێيان ێڶ ، مێانێڶېل Намибия — Намиб илI , намибилIел namib i/ , namibi/el — نامێب ێڶ ، نامێبێڶېل Науру — Наур илI , наурилIел naur i/ , nauri/el — نائۇر ێڶ ، نائۇرێڶېل Непал — Непал илI , непалилIел ne_al i/ , ne_ali/el — نېفال ێڶ ، نېفالێڶېل Нигер — Хьунданигир илI , хьунданигирилIел %undanifir i/ , %undanigiri/el — ڮۇنداصېب نێڬێر ێڶ ، ڮۇندانێڬێرێڶېل Нигерия — Бакъданигир илI , бакъданигирилIел baqdanigir i/ , baqdanigiri/el — باقداصېب نێڬێر ێڶ ، باقدانێڬێرێڶېل Нидерланды — Гьол илI , гьолилIел hol i/ , holi/el — هۈل ێڶ ، هۈلێڶېل Никарагуа — Никараг илI , никарагилIел nikarag i/ , nikaragi/el — نێكاراڬ ێڶ ، نێكاراڬێڶېل Новая Зеландия — Автар илI , автарилIел awtar i/ , awtari/el — اوتار ێڶ ، اوتارێڶېل Норвегия — Норг илI , норгилIел norg i/ , norgi/el — نۈرڬ ێڶ ، نۈرڬێڶېل ОАЭ — ГIараб Имаратал, амиратилIел farab imaratal, imaratiSel — عاراب ئێماراتار، امێراتێصېل Оман — ГIуман илI , гIуманилIел fuman i/ , fumani/el — عۇمان ێڶ ، عۇمانێڶېل Пакистан — Пак илI , пакилIел _ak i/ , _aki/el — فاك ێڶ ، فاكێڶېل Палау — Палав илI , палавилIел _alaw i/ , _alawi/el — فالاو ێڶ ، فالاوێڶېل Панама — Панам илI , панамилIел _anam i/ , _anami/el — فانام ێڶ ، فانامێڶېل Папуа — ЦIияб Гвин илI , гвинилIел `iyab gwin i/ , gwini/el — ڝێياب ڬوێن ێڶ ، ڬوێنێڶېل Парагвай — Паргав илI , паргавилIел _argaw i/ , _argawi/el — فارڬاو ێڶ ، فارڬاوێڶېل Перу — Перув илI , перувилIел _eruw i/ , _eruwi/el — فېرۇو ێڶ ، فېرۇوێڶېل Польша — Пол илI , полилIел _ol i/ , _oli/el — فۈل ێڶ ، فۈلێڶېل Португалия — Пуртугус илI , пуртугусилIел _urtugus i/ , _urtugusi/el — فۇرتۇڬۇس ێڶ ، فۇرتۇڬۇسێڶېل Россия — ГIоросс илI , гIороссилIел foros i/ , forosi/el — عۈرۈص ێڶ ، عۈرۈصێڶېل Руанда — Рунд илI , рундилIел rund i/ , rundi/el — رۇند ێڶ ، رۇندێڶېل Румыния — Румун илI , румунилIел rumun i/ , rumuni/el — رۇمۇن ێڶ ، رۇمۇنێڶېل Сальвадор — СалвадарилI, салвадарилIел salwadar i/ , salwadari/el — سالوادارێڶ، سالوادارێڶېل Самоа — СамовилI, самовилIел samow i/ , samowi/el — سامۈوێڶ، سامۈوێڶېل Сан-Марино — СанмаринилI, санмаринилIел sanmarin i/ , sanmarini/el — سانمارێنێڶ، سانمارێنێڶېل Сан-Томе и Принсипи — СантамилI, сантамилIел santam i/ , santami/el — سانتامێڶ، سانتامێڶېل Саудовская Аравия — СугIудилI, сугIудилIел sufud i/ , sufudi/el — سۇعۇدێڶ، سۇعۇدێڶېل Свазиленд — СвазилI, свазилIел swa# i/ , swa#i/el — سوازێڶ، سوازێڶېل Сейшельские Острова — СешелилI, сешелилIел se^el i/ , se^eli/el — سېشېلێڶ، سېشېلێڶېل Сенегал — СингалилI, сингалилIел singal i/ , singali/el — سێنڬالێڶ، سێنڬالێڶېل Сент-Винсент и Гренадины — СинвинилI, синвинилIел sinwin i/ , sinwini/el — سێنوێنێڶ، سێنوێنێڶېل Сент-Китс и Невис — НивисилI, нивисилIел niwis i/ , niwisi/el — نێوێسێڶ، نێوێسێڶېل Сент-Люсия — СенлусилI, сенлусилIел senlus i/ , senlusi/el — سېنلۇسێڶ، سېنلۇسێڶېل Сербия — СарабилI, сарабилIел sarab i/ , sarabi/el — سارابێڶ، سارابێڶېل Сингиб — СингибилI, сингилIел singib i/ , singi/el — سێنڬافۇرێڶ، سێنڬافۇرێڶېل Сирия — УсурилI, усурилIел usur i/ , usuri/el — ئۇسۇرێڶ، ئۇسۇرێڶېل Словакия — СалавакилI, салавакилIел slswak i/ , salawiki/el — سالاواكێڶ، سالاواكێڶېل Словения — СолованилI, солованилIел solowan i/ , solowani/el — سۈلۈوانێڶ، سۈلۈوانێڶېل США — Цолъарал Амарикалълъул Ракьал co;aral amarika:ul rapal — ښۈڸارال امارێكاڷۇل راڨال американцы - ЦАРилIел cari/el ښاراڶېل Соломоновы Острова — СоломилI, соломилIел solom i/ , solomi/el — سۈلۈمێڶ، سۈلۈمێڶېل Сомали — Бакъдассеб СсумалилI baqdaSeb Sumal i/ — باقداصېب صۇمالێڶ бакъдассумалилIел baqdaSumali/el — باقداصۇمالێڶېل Сомалиленд - Хьундассеб СсумалилI %undaSeb Sumal i/ — ڮۇنداصېب صۇمالێڶ хьундассумалилIел %undaSumali/el — ڮۇنداصۇمالێڶېل Судан — СуданилI, суданилIел sudan i/ , sudani/el — سۇدانێڶ، سۇدانێڶېل Суринам — СуринамилI, суринамилIел surinam i/ , surinami/el — سۇرێنامێڶ، سۇرێنامێڶېل Сьерра-Леоне — СерленилI, серленилIел serlen i/ , serleni/el — سېرلېنێڶ، سېرلېنێڶېل Таджикистан — ТажикилI, тажикилIел ta$ik i/ , ta$iki/el — تاجێكێڶ، تاجێكێڶېل Таиланд — ТайилI, тайилIел tay i/ , tayi/el — تايێڶ، تايێڶېل Танзания — ТанзанилI, танзанилIел tan#an i/ , tan#ani/el — تانزانێڶ، تانزانێڶېل Того — ТоголилI, тоголилIел togol i/ , togoli/el — تۈڬۈلێڶ، تۈڬۈلێڶېل Тонга — ТонгилI, тонгилIел tong i/ , tongi/el — تۈنڬێڶ، تۈنڬێڶېل Тринидад и Тобаго — ТубагилI, тубагилIел tubag i/ , tubagi/el — تۇباڬێڶ، تۇباڬێڶېل Тувалу — ТувалилI, тувалилIел tuwal i/ , tuwali/el — تۇوالێڶ، تۇوالێڶېل Тунис — ТунисилI, тунисилIел tunis i/ , tunisi/el — تۇنێسێڶ، تۇنێسێڶېل Туркмения — ТуркуменилI, туркуменилIел turkumen i/ , turkumeni/el — تۇركۇمېنێڶ، تۇركۇمېنێڶېل Турция — ТуркилI, туркилIел turk i/ , turki/el — تۇركێڶ، تۇركێڶېل Уганда — УгандилI, угандилIел ugand i/ , ugandi/el — ئۇڬاندێڶ، ئۇڬاندێڶېل Узбекистан — ОзбекилI, озбекилIел o#bek i/ , o#beki/el — ئۈزبېكێڶ، ئۈزبېكێڶېل Украина — ОкорилI, окорилIел okor i/ , okori/el — ئۈكرانێڶ، ئۈكرانێڶېل Уругвай — УргувилI, ургувилIел urguw i/ , urguwi/el — ئۇرڬۇوێڶ، ئۇرڬۇوێڶېل Уэльс — КимирилI, кимирилIел kimir i/ , kimiri/el — كێمێرێڶ، كێمێرێڶېل Федер. Штаты Микронезии — ГьитIинусилI, гьитIинусилIел hiTinus i/ , hiTinusi/el — هێطێنۇسێڶ، هێطێنۇسێڶېل Фиджи — ПижилI, пижилIел _i$ i/ , _i$i/el — فێجێڶ، فێجێڶېل Филиппины — ПилипилI, пилипилIел _ili_ i/ , _ili_i/el — فێلێفێڶ، فێلێفێڶېل Финляндия — СуумилI, суумилIел suum i/ , suumi/el — سۇئۇمێڶ، سۇئۇمێڶېل Франция — ПарангилI, парангилIел _arang i/ , _arangi/el — فارانڬێڶ، فارانڬێڶېل Хорватия — ХIорватилI, хIорватилIел \orwat i/ , \orwati/el — حۈرواتێڶ، حۈرواتێڶېل Центральноафриканская Республика — БакьулIаб ИприкъилI bapu/ab i_riq i/ — باڨۇڶاب ئێفرێقێڶ، باڨۇڶاب ئێفرێقێڶېل Чад — ЧадилI, чадилIел xad i/ , xadi/el — چادێڶ، چادێڶېل Черногория — ЧIчIегIерилI, чIчIегIерилIел Zefer i/ , Zeferi/el — ڄېعېرێڶ، ڄېعېرۇڅێڶېل Чехия — ЧехилI, чехилIел xe{ i/ , xr{i/el — چېخێڶ، چېخێڶېل Чили — ЧилилI, чилилIел xil i/ , xili/el — چێلێڶ، چێلێڶېل Швейцария — СсвиццирилI, ссвиццирилIел SwiCir i/ , SwiCiri/el — صوێڛێر ێڶ ، صوێڛێرێڶېل Швеция — СсверилI, ссверилIел Swer i/ , Sweri/el — صوېرێڶ، صوېرێڶېل Шотландия — УскутилI, ускутилIел uskut i/ , uskuti/el — ئۇسكۇتێڶ، ئۇسكۇتێڶېل Шри-Ланка — СарандилI, сарандибилIел sarandi/, sarandibi/el — ساراندێڶ، ساراندبێێڶېل Эквадор — АквадарилI, аквадарилIел akwadar i/ , akwadari/el — اكوادارێڶ، اكوادارێڶېل Экват-я Гвинея — БакьулIаб Гвин илI , гвинилIел bapu/ab gwin i/ , gwini/el — باڨۇڶاب ڬوێن ێڶ ، باڨۇڶاب ڬوێنێڶېل Эритрея — Иртар илI , иртарилIел irtar i/ , irtari/el — ئێرتار ێڶ ، ئێرتارێڶېل Эстония — Эстон илI , эстонилIел eston i/ , estoni/el — ئېستۈن ێڶ ، ئېستۈنێڶېل Эфиопия — ХIабаш илI , хIабашилIел \aba^ i/ , \aba^i/el — حاباش ێڶ ، حاباشێڶېل ЮАР — Бакъдассеб Иприкъ илI baqdaSeb i_riq i/ — باقداصېب ئێفرێق ێڶ ، باقدائێفرێقێڶېل Южный Судан — Бакъдассеб Судан илI , суданилIел baqdaSen sudan i/ , sudani/el — باقداصېب سۇدان ێڶ ، باقداسێدانێڶېل Ямайка — Ямак илI , ямакилIел yamak i/ , yamaki/el — ياماك ێڶ ، ياماكێڶېل Япония — Нипин илI , нипинилIел ni_in i/ , ni_ini/el — نێفێن ێڶ ، نێفێنێڶېل Пачалихъал (Ххал гьабулел Цолъарал Миллатазул ГIуцIцIиялда) _axali]al ({al habulel co;aral milata#ul fu~iyalda) جېڬێ طۇران ئېركېنڬۈ هېڃېل فاچالێڅال Ватикан — Ватикан илI , ватиканилIел watikan i/ , watikani/el — واتێكان ێڶ ، واتێكانێڶېل Палестина — ПилистIин илI , пилистIинилIел _ilisTin i/ , _ilisTini/el — فێلێسطێن ێڶ ، فێلێسطێنێڶېل Цо-цо пачалихъаз къабул гьарурал. co-co _axali]a# qabul harural ښۈ- ښۈ فاچالێڅاز قابۇل هارۇرال Абхазия — Апас илI , апасилIел a_as i/ , a_asi/el — افاس ێڶ ، افاسێڶېل Косово — Косов илI , косовилIел kosow i/ , kosowi/el — كۈسۈو ێڶ ، كۈسۈوێڶېل Северный Кипр — Турк Къубрусс илI , турк къубруссилIел turk qubruS i/ , turk qubruSi/el — تۇرك قۇبرۇص ێڶ ، تۇرك قۇبرۇصێڶېل Китайская Республика Тайвань — Хъитантайван илI , хъитантайванилIел ]itantaywan i/ , ]itantaywani/el — څێتانتايوان ێڶ ، څێتانتايوانێڶېل Южная Осетия — Бакъдассеб Гьирин илI , бакъдагьиринилIел baqdaSeb hirin i/ , baqdahirini/el — باقداصېب هێرێن ێڶ ، باقداهێرێڶېل Сахарская Арабская Демократическая Республика — ГIарабсахIар илI farabsa\ar i/ , farabsa\ari/el — عارابساحار ێڶ ، عارابساحارێڶېل ДНР — Данбасс илI , данбассилIел danbaS i/ , danbaSi/el — دانباص ێڶ ، دانباصێڶېل ЛНР — Луган илI , луганилIел lugan i/ , lugani/el — لۇڬان ێڶ ، لۇڬانێڶېل Къабул гьаричIел. qabul harizel قابۇل هارێڃېل فاچالێڅال Приднестровье — ДанустурилI, данустурилIел danusturi/, danusturi/el — دانۇستۇرێڶ ، دانۇستۇرێڶېل Сомалиленд — Хьундассеб Ссумал илI , хьундассумалилIел %undaSeb Sumal i/ , %undaSumali/el — ڮۇنداصېب صۇمال ێڶ ، ڮۇنداصۇمالێڶېل Дунялалълъул рахъал dunyala:ul ra]al دۇنيالاڷۇل راڅال Евразия - Ассувереб (Ассув-Эреб), ассув-эребиссел aSuwereb (aSuw-ereb) - اصۇو- ئېرېب - اصۇوېرېب، اصۇو- ئېرېبێصېل Европа - Эреб, эребиссел ereb, erebiSel - ئېرېب، ئېرېبێصېل Азия - Ассув, ассувиссел aSuw, aSuwiSel - اصۇو، اصۇوێصېل Африка - Иприкъ, Иприкъиссел i_riq, i_riqiSel - ئێفرێق، ئێفرێقێصېل Австралия - Оз, озиссел o#, o#iSel - ئۈز، ئۈزێصېل Северная Америка - Хьундассеб Амарик, амарикиссел %undaSeb amarik, amarikiSel - ڮۇنداصېب امارێك، ڮۇندائامارێكێصېل Южная Америка - Бакъдассеб Амарик, амарикиссел baqdaSeb amarik, amarikiSel - باقداصېب امارێك، باقدائامارێكێصېل

bottom of page