
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Результаты поиска
2069 results found with an empty search
- Кӏиго гьерссихъан | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
КІИГО ГЬЕРССИХЪАН ВукӀанила, вукӀинчӀила кӀиго мадугьал. Гьезул цояссул цӀцӏар Дацци букӀанила, цояссул Ацци букӏанила. Гьез кидаго цоцазе гьерссал рицунаанила. ГӀемер гьединал гьерссал рициналълъ, гьел аххирги жалгоги божизе лӏугьанила жидедаго. Цо нухалълъ Даццицца Аццида абунила: - Дир инссул букӀана лълъиданиги ххалалъи борцине кӀоларебгӀан кӀудияб чол бокь. Цояб рахъалдасса цогидаб рахъалде щвезегӀан щибаб нухалълъ гӀалаялълъ цо-цо тагьи гьабулаан. Гьеб гӀажаиблъи гьабизе ккараб жо гьечӀищхха, Ацци? - Буго. Гьелдассаги гӀажаиблъи гьабизе ккаралги жал ругелхха. Дуда лъалищ, нижер букӀана цо кӀудияб къвалакь чІвалеб тӀил. Гьалагал накӀкӀал зодоре рачӀингун, нижер эбел азбаралде кӀанцӀулаан, цинги гьебги хьвагӀун, накІкӀал нахъе рачахъулаан. Гьелдасса ххадуб цӀцӏадги балароан. - ВахІ, унго киб лъунхха нужецца гьеб тӀил цӀунулеб букӀараб? - ан гьикъанила гьалмагъассул ххарбицца тамашалъизавурав Даццицца. - Унго, дуда лъаларебанищ, нижецца гьеб тӀил нужер доб чуязул бокьалълъул мукърукь къазабун букӀин? - ан суалалълъе суалалдалъун жаваб кьунила Аццицца. jigo herSi]an wujanila, wujinzila jigo maduhal. heRul coyaSul Var daCi bujanila, coyaSul aCi bujanila. heR kidago cocaRe herSal ricunaanila. femer hedinal herSal ricina', hel a{irgi Dalgogi boDiRe fuhanila Didedago. co nu[a' daCiCa aCida abunila - dir inSul bujana 'idanigi {ala;i borcine jolarebfan judiyab xol bop. coyab ra]aldaSa cogidab ra]alde ?weRefan ?ibab nu[a' falaya' co-co tahi habulaan. heb faDaib;i habiRe Karab Do hezi?{a, aCi& - bugo. heldaSagi faDaib;i habiRe Karalgi Dal rugel{a. duda ;ali?, niDer bujana co judiyab qwalap zwaleb Til. halagal naJal Rodore razingun, niDer ebel aRbaralde janvulaan, cingi hebgi Fwafun, naJal na]e racha]ulaan. heldaSa {adub Vadgi balaroan. - wa\, ungo kib ;un{a nuDeCa heb Til vunuleb bujarab& - an hiqanila halmaGaSul {arbiCa tama/a;iRawuraw daCiCa. - ungo, duda ;alarebani?, niDeCa heb Til nuDer dob xuyaRul bopa'ul muqrup qaRabun bujin& - an suala'e sualalda;un Davab punila aCiCa.
- Бархъалисселги Мала Нассрудинги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
БАРХЪАЛИССЕЛГИ МАЛА НАССРУДИНГИ Ххасел бакьулӏ цӀулги тӀагӀун, Мала Нассрудин анила, хӀамаги бачун, рохьове. Цо кӀудияб гъотӀодеги вахун, живго тӀад чӀчӏараб гӀаркьел къотӀизе лӏугьанила гьев. Гьениб асскӀоссан нухги букӀанила. Чуязда, гӀурцІмазда лъун щагӀил батӀи-батӀияб цІарагІгун, гьеб бичизе базаралде рачӀунел бархъалиссел щванила гьенире. Живго тӀад чӀчӏун вугеб гӀаркьел къотӀулев Мала Нассрудин вихьараб меххалълъ, гьез абунила: - Гӏадаллъунищ, вацц, мун вугев, гьеб гӀаркьел дуцца къотӀани, гьебгун цадахъ мунги гӀодове вортула гури? - ян. - Гьеб нужер иш гуро, нуж нужерго нух ккун а, дир милат дицца гьабила, - ян абунила Мала Нассрудиницца, живгоги тӀад вугеб гӀаркьел къотӀизе лӏугьанила. Мехх балелдего, гӀаркьелгун цадахъ Мала Нассрудинги анила вортун. ВахІ, гьанисса гӀодове дун вортизе вукӀин лъалел чагӀазда кида дун холевалиги лъазе ккола. Гьеб цӀеххон лълъикӀ дицца гъоздаянги абун, Мала Нассрудин вортанила бархъалиссезда ххадув. ЧӀчӏезе гьелги гьарун, гьикъанила гьесс: - Дун гъотӀодасса гӀодове вортизе вукӀин лъалел чагӀазда дун кида холевалиги лъазе ккола нужеда. Аллагьассе гӀоло, бице дун холеб заман. ГӀантав гьав чи ххеххго тӀасса вихьизавун лълъикӀилан пикруги гьабун, гьез абунила: - ЛъабцӀцӏул мун чинхъараб меххалда, дур иш лӏугӀула, Мун хвезе вуго гьеб меххалълъ. Кутакалда ургъелги чІван, къотӀараб гӀаркьелги хӏамида лъун, Мала Нассрудин рокъове вилълъанила. ГӀемер мехх балалдего, цо чинхъанила гьев. «Цо рухІ ана, ххутӀана», - ян абунила жинццаго жиндаго. Цо дагьабго заманалдассан кӀиабизеги чинхъанила гьев. КӀигояб рухӏги анин, гьанже цо рухІ ххутӀанин, гьебги иналде рокъовегӀаги ворчӀизе хӀаракат бахъун лълъикӀилан, дагьаб ххеххлъи гьабунила Мала Нассрудиницца. Азбаралде щун вахъиналде, лъабабилеб нухалдаги чинхъанила гьев. - Ххеххлъи гьабе, чӀчӏужу, лъабабилеб рухІги ана. Дун хвана! - ян ахІделаго, Мала Нассрудин кӀалагъоркье гӀодов речІчӀанила азбар бакьулӏ. Накаби руххизе, чӀичӀидизе, гӀергӀедизе рукъалълъул агьлуги лӏугьанила, гьезул гьаркьихъе ххабар рагӀа-рагӀарал рачӀун, азбар ххалкъалълъулги цӀунила. Щиб, кинилан гьикъидал, Мала Нассрудин хванилан бицанила чӀчӏужуялълъ. Хварав чи ххалат тун гьабизе жо гьечӀилан, гьебго къоялда вукъанила Мала Нассрудин. Хабалӏе лӏугьун, къанал рекъезарулел рукӀарал гӀолохъабазда гьаранила Мала Нассрудиницца, жиндир ракӀгъун букӀине, цо гьитӀинаб каратІ тейин къватӀибеххунилан. Гьезги, гьессул гьари къабул гьабун, хабалӏа къватӀибе каратІ танила. Мала Нассрудинги вукъун, жамагӀатги анила нахъе, хабалӏе тараб гьитӀинабго картӀиниссан къватӀиве валагьун Мала Нассрудинги вукӀанила. Гьессул хобги кканила шагьра нухда асскӀобе. Кин бугониги цо сордо хабалӏги бан, нахъияб къоялълъ радал ххеххгого щиб ххабардай рагӀилаян, картӀиниссан шагьра нухде валагьун вукӀанила Мала Нассрудин. Квачараб, гӀодоб цӀцӏер тӀураб къоги букӀанила гьеб. Балагьанила, долго бархъалиссел ругила, сордо доб росулӏги бан, радалго рахъун, щегӀ бичизе базаралде унел. ТӀад бакӀал гьирал лъурал гьезул чуял, гӀурцІмал ругила цӀцӏородассан рилълъине кӀоларого, хъещтӀелел. Дицца бихьилин гьазие гьабулеб жоянги абун, битӀун хабалӏа къватӀибе каратІ бугеб бакӀалде гьел щвараб меххалълъ, цо квешал, гӀассиял гьаркьал гьарунила Мала Нассрудиницца. Гьел гьаркьал рагӀаралго, риххун, хӀинкъун лӏугьун, тӀад гьиралгун ругел чуялги гӀурцІмалги хъущтӀун гӀодор речІчӀанила, гӀемераб щегӀги гъуранила. Гьаб хабалӏа къватӀибе рогьалилӏ ахІдолеб цо шайтӀан батизе кколилан, рортун ун бархъалиссез картӀинисса жанире хабалӏе цӀцӏалагӀоркьалги къакъазарун, Мала Нассрудинил ссипат-къоноялълъул ччукӏичӏеб бакӀ течӀила. Гъурараб щегӀги нухдаго тун, бархъалисселги анила, гӀемераб заман балалдего, хабалӏе букӀараб каратӀги кӀодо гьабун, гьенисса къватӀивеги лӏугьун, Мала Нассрудинги рокъове вилълъанила. Хваралълъусса вахъун Мала Нассрудин вачӀун вугилан рагӀун, росдал агьлуго бачӀанила гьев вихьизе. - Гьа, Мала Нассрудин, гӀакъуба-къварилъи щиб бихьараб, хабал гӀазаб кинаб жо бугеб? - ан цӀеххолданила гьессда. - Валлагь, ваццал, гьересси щай, бархъалиссезул цӀцӏалагӀоркьазулалдасса кӀудияб гӀазаб хабалӏ дида батичӀо, - ян абунила Мала Нассрудиницца. Нахъиссел къоязда бархъалиссезул гъурараб щегI rlaдада течӀого, дагьабги гӀиссин гьабун, къандалъаби цӏун, базаралде босанила Мала Нассрудиницца, гӀункӏкӏал холеб дару бугин гьабиланги абун, гьеб бичизе лӏугьанила. ТӀаде бакӀарун ххалкъалълъ, хъамал гьабун, босун унеб букӀанила гьеб. ГӀемераб гӀарац Мала Нассрудиниеги щванила. Аххиралда ххутӀараб цо дагьаб жо босулаго, цо чиясс гьикъанила Мала Нассрудинида: - Кин гьалълъ гӀункІкӀал хвезарулел? - ан. - Кквезеги ккун, бадибе гьаб дару бани, бералги беццлъун, доре-гьанире ккун хола, - ян абунила Малла Нассрудиницца. - Кквезе щун ххадуб, гӀодоб речІчӀун хвезабиларищ гӀункІкІ? - Дуего бокьани, гьедин гьабизеги бегьила, - ян жаваб кьунила Мала Нассрудиницца. bar]aliSelgi mala naSrudingi {asel bapu` vulgi Tafun, mala naSrudin anila, \amagi baxun, roFowe. co judiyab GoTodegi wa[un, Diwgo Tad Zarab farpel qoTiRe `uhanila hew. henib aSjoSan nu[gi bujanila. xuyaRda, furvmaRda ;un ?afil baTi-baTiyab varafgun, heb bixiRe baRaralde razunel bar]aliSel ?wanila henire. Diwgo Tad Zun wugeb farpel qoTulew mala naSrudin wiFarab me{a', heR abunila - fadal;uni?, waC, mun wugew, heb farpel duCa qoTani, hebgun cada] mungi fodowe wortula guri& - yan. - heb nuDer i/ guro, nuD nuDergo nu[ Kun a, dir milat diCa habila, - yan abunila mala naSrudiniCa, Diwgogi Tad wugeb farpel qoTiRe `uhanila. me{ baleldego, farpelgun cada] mala naSrudingi anila wortun. wa\, haniSa fodowe dun wortiRe wujin ;alel xafaRda kida dun [olewaligi ;aRe Kola. heb ve{on 'ij diCa GoRdayangi abun, mala naSrudin wortanila bar]aliSeRda {aduw. ZeRe helgi harun, hiqanila heS - dun GoTodaSa fodowe wortiRe wujin ;alel xafaRda dun kida [olewaligi ;aRe Kola nuDeda. alahaSe folo, bice dun [oleb Raman. fantaw haw xi {e{go TaSa wiFiRawun 'ijilan <ikrugi habun, heR abunila - ;abVul mun xin]arab me{alda, dur i/ `ufula, mun [weRe wugo heb me{a'. kutakalda urGelgi zwan, qoTarab farpelgi \amida ;un, mala naSrudin roqowe wi'anila. femer me{ balaldego, co xin]anila hew. «co ru\ ana, {uTana», - yan abunila DinCago Dindago. co dahabgo RamanaldaSan jiabiRegi xin]anila hew. jigoyab ru\gi anin, hanDe co ru\ {uTanin, hebgi inalde roqowefagi worziRe \arakat ba]un 'ijilan, dahab {e{;i habunila mala naSrudiniCa. aRbaralde ?un wa]inalde, ;ab~abileb nu[aldagi xin]anila hew. - {e{;i habe, ZuDu, ;ab~abileb ru\gi ana. dun [wana! - yan a\delago, mala naSrudin jalaGorpe fodow reZanila aRbar bapu`. nakabi ru{iRe, zizidiRe, ferfediRe ruqa'ul ahlugi `uhanila, heRul harpi]e {abar rafa-rafaral razun, aRbar {alqa'ulgi vunila. ?ib, kinilan hiqidal, mala naSrudin [wanilan bicanila ZuDuya'. [waraw xi {alat tun habiRe Do hezilan, hebgo qoyalda wuqanila mala naSrudin. [aba`e `uhun, qanal reqeRarulel rujaral folo]abaRda haranila mala naSrudiniCa, Dindir rajGun bujine, co hiTinab karaT teyin qwaTibe{unilan. heRgi, heSul hari qabul habun, [aba`a qwaTibe karaT tanila. mala naSrudingi wuqun, Damafatgi anila na]e, [aba`e tarab hiTinabgo karTiniSan qwaTiwe walahun mala naSrudingi wujanila. heSul [obgi Kanila /ahra nu[da aSjobe. kin bugonigi co sordo [aba`gi ban, na]iyab qoya' radal {e{gogo ?ib {abarday rafilayan, karTiniSan /ahra nu[de walahun wujanila mala naSrudin. kwaxarab, fodob Ver Turab qogi bujanila heb. balahanila, dolgo bar]aliSel rugila, sordo dob rosu`gi ban, radalgo ra]un, ?ef bixiRe baRaralde unel. Tad bajal hiral ;ural heRul xuyal, furvmal rugila VorodaSan ri'ine jolarogo, ]e?Telel. diCa biFilin haRiye habuleb Doyangi abun, biTun haba`a qwaTibe karaT bugeb bajalde hel ?warab me{a', co kwe/al, faSiyal harpal harunila mala naSrudiniCa. hel harpal rafaralgo, ri{un, \inqun `uhun, Tad hiralgun rugel xuyalgifurvmalgi `u?Tun fodor reZanila, femerab ?efgi Guranila. hab haba`a qwaTibe rohali` a\doleb co /ayTan batiRe Kolilan, rortun un bar]aliSeR karTiniSa Danire [aba`e Valaforpalgi qaqaRarun, mala naSrudinil Si<at-qonoya'ul Xujizeb baj tezila. Gurarab ?efgi nu[dago tun, bar]aliSelgi anila, femerab Raman balaldego, [aba`e bujarab karaTgi jodo habun, heniSa qwaTiwegi `uhun, mala naSrudingi roqowe wi'anila. [wara'uSa wa]un mala naSrudin wazun wugilan rafun, rosdal ahlugo bazanila hew wiFiRe. - ha, mala naSrudin, faquba-qwari;i ?ib biFarab, [abal faRab kinab Do bugeb& - an ve{oldanila heSda. - walah, waCal, hereSi ?ay, bar]aliSeRul ValaforpaRulaldaSa judiyab faRab [aba` dida batizo, - yan abunila mala naSrudiniCa. na]iSel qoyaRda bar]aliSeRul Gurarab ?ef fadada tezogo, dahabgi fiSin habun, qanda;abi vun, baRaralde bosanila mala naSrudiniCa, funJal [oleb daru bugin habilangi abun, heb bixiRe `uhanila. Tade bajarun {alqa', ]amal habun, bosun uneb bujanila heb. femerab farac mala naSrudiniyegi ?wanila. a{iralda {uTarab co dahab Do bosulago, co xiyaS hiqanila mala naSrudinida - kin ha' funJal [weRarulel& - an. - KweRegi Kun, badibe hab daru bani, beralgi beC;un, dore-hanire Kun [ola, - yan abunila mala naSrudiniCa. - KweRe ?un {adub, fodob reZun [weRabilari? funJ& - duyego bopani, hedin habiRegi behila, - yan Dawab punila mala naSrudiniCa.
- Бацӏил кечӏ | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Бацӏил кечӏ. Хӏамаги, дегӏенги, бечеги, хӏелекоги рукӏанила гьудул-гьалмагълъиялда. Цо къоялълъ гьал рукӏанила росдадасса дагьаб рикӏкӏадаб бакӏалде рахъун расандулел. Араб лъачӏого къоги ун, къасси сордо щванила. Бакъвараб гӏучӏ-мучӏги бакӏарун, гьелда цӏаги гъун, цӏадуда ссверухъе ракӏарун, ххинлъулел рукӏанила гьал. Дагӏницца бицанкӏаби чӏвалел рукӏанила, хӏелкицца кечӏ ахӏулаанила, бече гъазухъ гӏенеккун букӏанила, хӏама цӏадуда ссверун лӏугьун, гьелълъул тӏалабалда букӏанила, дагьаб добегӏан бецӏцӏаб, канлъи бихьулареб сордо букӏанила. Цо заманалдассан гьазда рагӏанила цо гьаракь: Вай, бецӏцӏлъи щиб дунялалълъул? Квачацца холеб дун ххинлъизе биччай! – ян ахӏделаго, тӏаде бачӏанила бацӏ. Хӏамаги, дегӏенги, бечеги, хӏелекоги цӏакъ хӏинкъанила, гьазни бацӏида хӏал лъазе биччачӏила. Мун гьедигӏан квачан батани, бачӏа дурго ххинлъизе цӏадухъе, дуеги гӏелин гьаниб бакӏ, - ан абунила гьаз. Цӏадухъ лълъикӏаб хӏалалда ххинлъанила бацӏ, цинги гьалда ракӏалда щванила тӏубараб къоялълъ кваназе жоги щвечӏого, жибго бакъун букӏин. Гьазул киналдассандай кваназе байбихьила абун, лълъикӏаб хӏалалда ххал гьабунила гьалълъ хӏамилги, дагӏнилги, бачилги, хӏелкилги. Щиб гьабулел нуж, ахӏулеб букӏараб кечӏги чӏчӏезе тун, дихъ ралагьун! Ворея, цо чагур кьея дихъе, - ян абунила бацӏицца. Кьунила бацӏихъе чагур. Чагуралълъул чӏчӏвабзада кӏутӏулаго, бацӏицца гьадин ахӏанила: “ Хӏелеко кьара буго, Лълъикӏаб квине жо буго. Байбихьилищ гьелдассан, Далай, далай, далалай! Дегӏенги квешаб гьечӏо, Гьеб радал квен буго, Гьелдассанги бегьила Байбихьизе, далалай! Валлагь, бечеги буго Моххмохх гӏадаб кьарияб. Къассикваний бегьила, Далай, далай, далалай! Хӏамайилан абуни, Гьеле дие къадеквен. Гьалдассан байбихьизин, Далай, далай, далалай!” Жиндирго хӏакъалълъулӏ бацӏицца ахӏулеб кочӏол рагӏаби рагӏараб меххалълъ, рекӏелӏе бачӏараб хӏинкъиги баххчулаго, хӏамицца абунила бацӏида: Кьея дихъеги чагур, цо дицца ахӏулеб куц дудаги рагӏизе, - ян, бацӏихъа чагурги босун, кӏутӏулаго гьелдагун, гьадин ахӏанила: “Кина-щинабго гуреб, Къадекваний бегьулеб. Чӏвалеб дур кӏал щанкӏлицца, Далай, далай, далалай!” Тӏаде дагӏниццаги жубанила: “Бегӏерал лӏурдул тункун, Чехь диццаги бихъила, Дунги хӏинкъун чӏчӏеларо, Далай, далай, далалай!” Хӏелкиццаги ахӏанила: “Бацӏил берал рахъила, Беццаб хӏехьлъун гьабила. Бачӏа абе асскӏобе, Далай, далай, далалай!” Киназухъго гӏинтӏамунги букӏун, тӏарамагъада боххуцца холаго бачиццаги тӏаде жубанила: “Дунги нужей хӏалае Хӏадур буго бахъине, Хӏинкъуге нуж бацӏикьа, Далай, далай, далалай!” Киназго ахӏулеб кочӏол магӏнаги бичӏчӏун, бацӏ хӏинкъанила, гьелълъги лӏути бахъинабунила. Роххуцца холаго ххадур ахӏтӏелел, пещтӏелел хӏамаги, дегӏенги, хӏелекоги, бечеги рукӏанила. Гьелдасса ххадур гьал бацӏиде гьабураб кечӏ ахӏизеги, рагӏизеги цӏадухъе ракӏарунилаанила зама-заманалда.
- Гӏачивехь | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ГІАЧИВЕХЬ ГьерекӀдерил магӀарда жамагӀаталълъул гӀачиязда вукӀун вугила къватӀиб росулӏа вачӀарав цо мискинав чи. Гьеб заманалда хьиндалазул гӀезегӀанго гӀадамал унел рукӀун руго Азайниб вугев хханассухъе, гьессие сайгъаталълъе батӀи-батӀияб пихъил цӀурал гьагьалги лъун, хӀамулги рачун. Гьев хханассги жив кӀодо гьавун рачӀарал гьел гӀадамазе гьез бачӀаралдаго рекъараб батӀи-батӀияб сайигъат-салам кьун, ритӀулел рукӀанила. Ххассго басрияб, бихъа-тараб ретӀел-хьит, партал гӀемер кьолеб букӀанила гьесс. Цо нухалда дов гӀачивехьассул чӀчӏужуялълъ жиндирго россассда абунила: - Ле, дир бетӀергьанчи, нилӏги хьит-парталалълъул цӀакъго язихъго руго, мунги щай унарев Азайниве хханассухъе, гьессие кинаб букӀаниги сайигъатги босун. Гьенире арал гӀадамалги, партал-хьитги щун, рачӀунел руго, - ян. - Дунни гьениве кутакалда инаан, гьессие босизе жо бугебани, нилӏерго щибго гьечӀо гури, щиб босун дун гьессухъе инев? - ан абунила россасс. - Дицца курак балагьилин, гьедин батани, мун ине къачӀай, — ан абунила чӀчӏужуялълъ. Чанго къоялълъ тӀатӀалаго батӀи-батӀиял гӀадамазе ццебе ккара-ккараб хӀалтӀи гьабизеги хьвадун, цо хӀамида лъезе гьагьал цӀезегӀанассеб курак балагьанила чӀчӏужуялълъ. Цо кӀудияб сапаралълъ къватӀиве вахъунев чи гӀадин, рачІчӏ хӀулараб хӀамида куракул гьагьалги лъун, Азайниб хханассухъе сапарги бухьун, вехьги къватӀиве вахъанила. Россасс гьенисса рачӀунел жалазул пикрабиги гьарулаго, йохха-ххинлъун гьев вачӀинегӀан, гӀачиязде хьвадилей чӀчӏужуги йикӀанила. ГьерекІдерил мегӀерги бегун, эрпелдерил магӀарде щвараб меххалда, вехьассда дандчІванила кутакалда ретӀел-хьиталълъ къачӀарал, месед-гӀарцуцца гвангъизабураб ярагъги барал, гъоркь чӀчӏоларел кьариял чуязда рекӀерал цо чагӀи. ГӀачивехь данде ккейгун, гьез чуял лъалхъизарунила, цинги бищунго ццеве вукӀарасс, нухлулассдеххунги вуссун, гьадин абунила: - Ле, нухлулав, мун щив чи, мун кисса вачӀунев, киве унев чи? - ян. «Мун щив чи?» - абураб суалалълъе «Дун вуго цо чи», ян жавабги кьун, цогидал суалазе жавабги кьечӀого, гьев ине лӏугьанила. Жидее дагьаб курак бичейилан гьаранила гьесс гӏачивехьассда. ГӀачивехьасс абунила: - Валлагь, бичиларо, гьеб буго цӀакъ рикӏкӀадасса бахъараб Азайнисса хханассе сайгъаталълъе босун унеб бугеб жо, - ян. ГӀемер гьарданила гьел гьессда дагьаб жогӀаги бичеян, жидецца дуе дуцца абураб гӀарацги кьелин. Нужецца кигӏан гӀемераб гӀарац кьуниги, бичиларилан вехьассги абунила. - ЛълъикӀ бугохха, а дурго Азайниве, ян абунила гьессда хъахӀаб чода рекӀун вукӀарав чиясс. Гьев чи живго Азайнисса ххан вукӀанила. Жиндирго хӀамаги ццебе къотӀун, вехь Азайниве валагьун вилълъанила. МагӀардаги ссверун, хханги гьессул нукарзабиги вехьассдасса ццере рокъоре щванила. Гьел рукӀанила ххангун цадахъ мугӀрузде рекӀелгъеялълъе тира-ссверизе арал чагӏи. Цо заманалдассан гӀачивехьги щванила Азайниве, хханассул рукъги цӀеххон, гьенив рещтӀанила, гьессие сайигъаталълъе босараб куракги кьунила. Хханассул чагӀаз гьессиеги, хъизамалълъеги бихъа-тараб ретӀел-хьитги гӀарацги кьунила, цинги нахъияб къоялълъ, берцинго, разиго нухда лъунила. ГӀачивехь нухде вахъун гӀемер мехх балелде, нукарзабаздасса цоясс хханассда гьадин абунила: - Гьадав гьоболассе кьурабгӀанассеб жо, гьабго щинаб заманалда дуе нукарлъи гьабулел ругониги, дуцца нижее кьечӀо. Гьеб дир ракӀалълъе цӀакъ захІмалъана. ГьабсагӀаталда доссда ххадувги ун, дуцца доссие кьураб жо бахъизе ракӀалде ккун буго дида, - ян. - ЛълъикӀ буго, - ян абунила жиндирго нукар къварид гьавизе бокьичӀого хханасс, - цинги дуцца доссие ярагъ-квералдалъун щибго жо гьабуге, кӀолеб бугони, ххабар-кӀалалдалъун бахъе. Бан лълъикӀаб ярагъгун, рекӀун чодагун, нукар вахъанила гӀачивехьассда ххадув. Хханассул ракь телалдего, нукар гьессда ххадув гъунила, цинги борххатаб гьаркьидалъун ахӀанила гӀачивехьассде: - Ле, нухлулав, мун чӀчӏа, хханасс дун витӀун вуго мун нахъвуссинавун жиндихъего вачейилан! - ян. Щибизедай дун гьессие абун, батӀи-батӀиял пикрабиги гьарулаго, вехь цӀакъго ургъалилӏе кканила. Гьев дагьавги захІматаб хӀалалде ккезавизе къваригӀун, тӀаде щварав нукарасс гьессда абунила: - Дицца кьураб лъабго суалалълъе дуцца битӀун жаваб кьуни, дицца мун нахъвуссинавун вачинчӀого тела, - ян. ЛълъикӀ бугилан вехьги разилъанила. - Кье дурго суалал, дицца кІвараб куцалда дур гьел суалазе жаваб кьела, - ян абунила вехьасс. - Гьаб дунялалълъул бакьулӏ бакӀ киб бугеб? - ан гьикъанила нукарасс гьессда тӀоццебе. - Гьаб дир чӀчӏегӀераб хӀамил щинкӀил чӀчӏараб бакӀалда гъоркь буго, гьелда божиларин ккани, борце дуццаго, - ян абунила гӀачивехьасс нукарассда. Бегьанила вехьассул гьеб жаваб нукарассе. - Гьадаб зодоб чан цІцӏва бугеб? — ан гьикъанила кӀиабизеги нукарасс гӀачивехьассда. - Гьаб дир чӏчӏегӏераб хӏамида чан рас батаниги, гьедигӀан цІцӏва буго зодоб, гьелда дур щаклъи кколеб батани, рикІкӀе дуццаго, ян жаваб кьунила гьелда дандеги гӏачивехьасс. Бегьанила гьеб жавабги нукарассе. - Гьанже дуцца бице бищун ясазе вокьулев чи щивали? - Ян гьикъанила лъабабизеги нукарасс. - Гьеб дуцца ретӀун бугеб ретӀелги, бан бугеб ярагъги, гъоркь рекӀун бугеб чуги дихъе кье, - ян абунила, ххал хъубав нукарассда ракӀалда бугеб жо бичӏчӀизе лӏугьарав гӀачивехьасс, - гьебмеххалда дицца бихьизабила дуда ясазе вокьулев чи кинав вукӀуневали. Хисанила гьез ретӀелги, банила гӀачивехьасс нукарассул ярагъги, ваханила гьев нукарассул чодеги, цинги «Ясазе гьадинав чи вокьула!» янги ахӀун, кьабун чода цІцӏалгун, «Дуе къо-мехх лълъикӏ!» - илан нукарассдаги абун, бухъизабунила гӀачивехьасс рокъобе. Вехьассул хӀул-хӀулараб чӀчӏегІераб хӀамаги ццебе къотӀун, хханассухъе тӀадвуссун нукарги анила. ГӀачивехьассулги жиндиргоги ккараб гьесс хханассда бицанила. Гьебмеххалда хханасс гьессда абунила: - ЧӀалгӀаде гуреб досс, мун щиван гьикъараб меххалълъ, дун цо чи вугилан доб магӀардаго абун букӀараб. Долълъул магӀна букӀана, дун вуго цо чияссда данде чи абураб магӀна, - ян. faxiweF herejderil mafarda Damafata'ul faxiyaRda wujun wugila qwaTib rosu`a wazaraw co miskinaw xi. heb zamanalda FindalaRul feRefango fadamal unel rujun rugo aRaynib wugew {anaSu]e, heSiye sayGata'e baTi-baTiyab <i]il cural hahalgi ;un, \amulgi raxun. hew {anaSgi Diw jodo hawun razaral hel fadamaRe heR bazaraldago reqarab baTi-baTiyab sayiGat-salam pun, riTulel rujanila. {aSgo basriyab, bi]a-tarab reTel-Fit, <artal femer poleb bujanila heS. co nu[alda dow faxiweFaSul ZuDuya' Dindirgo roSaSda abunila - le, dir beTerhanxi, ni`gi Fit-<artala'ul vaqgo yaRi]go rugo, mungi ?ay unarew aRayniwe {anaSu]e, heSiye kinab bujanigi sayiGatgi bosun. henire aral fadamalgi, <artal-Fitgi ?un, razunel rugo, - yan. - dunni heniwe kutakalda inaan, heSiye bosiRe Do bugebani, ni`ergo ?ibgo hezo guri, ?ib bosun dun heSu]e inew& - an abunila roSaS. - diCa kurak balahilin, hedin batani, mun ine qazay, — an abunila ZuDuya'. xango qoya' TaTalago baTi-baTiyal fadamaRe Cebe Kara-Karab \alTi habiRegi Fwadun, co \amida ;eRe hahal veRefanaSeb kurak balahanila ZuDuya'. co judiyab sapara' qwaTiwe wa]unew xi fadin, raZ \ularab \amida kurakul hahalgi ;un, aRaynib {anaSu]e sa<argi buFun, weFgi qwaTiwe wa]anila. roSaS heniSa razunel DalaRul <ikrabigi harulago, yo{a-{in;un hew wazinefan, faxiyaRde Fwadiley ZuDugi yijanila. herejderil mefergi begun, er<elderil mafarde ?warab me{alda, weFaSda dandzwanila kutakalda reTel-Fita' qazaral, mesed-farcuCa gwanGiRaburab yaraGgi baral, Gorp Zolarel pariyal xuyaRda rejeral co xafi. faxiweF dande Keygun, heR xuyal ;al]iRarunila, cingi bi?ungo Cewe wujaraS, nu[lulaSde{ungi wuSun, hadin abunila - le, nu[lulaw, mun ?iw xi, mun kiSa wazunew, kiwe unew xi& - yan. «mun ?iw xi&» - aburab suala'e «dun wugo co xi», yan Dawabgi pun, cogidal sualaRe Dawabgi pezogo, hew ine `uhanila. Dideye dahab kurak bixeyilan haranila heS faxiweFaSda. faxiweFaS abunila - walah, bixilaro, heb bugo vaq riJadaSa ba]arab aRayniSa {anaSe sayGata'e bosun uneb bugeb Do, - yan. femer hardanila hel heSda dahab Dofagi bixeyan, DideCa duye duCa aburab faracgi pelin. nuDeCa kifan femerab farac punigi, bixilarilan weFaSgi abunila. - 'ij bugo{a, a durgo aRayniwe, yan abunila heSda ]a\ab xoda rejun wujaraw xiyaS. hew xi Diwgo aRayniSa {an wujanila. Dindirgo \amagi Cebe qoTun, weF aRayniwe walahun wi'anila. mafardagi Swerun, {angi heSul nukarRabigi weFaSdaSa Cere roqore ?wanila. hel rujanila {angun cada] mufruRde rejelGeya'e tira-SweriRe aral xafi. co RamanaldaSan faxiweFgi ?wanila aRayniwe, {anaSul ruqgi ve{on, heniw re?Tanila, heSiye sayiGata'e bosarab kurakgi punila. {anaSul xafaR heSiyegi, ]iRama'egi bi]a-tarab reTel-Fitgi faracgi punila, cingi na]iyab qoya', bercingo, raRigo nu[da ;unila. faxiweF nu[de wa]un femer me{ balelde, nukarRabaRdaSa coyaS {anaSda hadin abunila - hadaw hobolaSe purabfanaSeb Do, habgo ?inab Ramanalda duye nukar;i habulel rugonigi, duCa niDeye pezo. heb dir raja'e vaq Ra\ma;ana. habsafatalda doSda {aduwgi un, duCa doSiye purab Do ba]iRe rajalde Kun bugo dida, - yan. - 'ij bugo, - yan abunila Dindirgo nukar qwarid hawiRe bopizogo {anaS, - cingi duCa doSiye yaraG-kweralda;un ?ibgo Do habuge, joleb bugoni, {abar-jalalda;un ba]e. ban 'ijab yaraGgun, rejun xodagun, nukar wa]anila faxiweFaSda {aduw. {anaSul rap telaldego, nukar heSda {aduw Gunila, cingi bor{atab harpida;un a\anila faxiweFaSde - le, nu[lulaw, mun Za, {anaS dun wiTun wugo mun na]wuSinawun Dindi]ego waxeyilan! - yan. ?ibiReday dun heSiye abun, baTi-baTiyal <ikrabigi harulago, weF vaqgo urGali`e Kanila. hew dahawgi Ra\matab \alalde KeRawiRe qwarifun, Tade ?waraw nukaraS heSda abunila - diCa purab ;abgo suala'e duCa biTun Dawab puni, diCa mun na]wuSinawun waxinzogo tela, - yan. 'ij bugilan weFgi raRi;anila. - pe durgo sualal, diCa jwarab kucalda dur hel sualaRe Dawab pela, - yan abunila weFaS. - hab dunyala'ul bapu` baj kib bugeb& - an hiqanila nukaraS heSda ToCebe. - hab dir Zeferab \amil ?injil Zarab bajalda Gorp bugo, helda boDilarin Kani, borce duCago, - yan abunila faxiweFaS nukaraSda. behanila weFaSul heb Dawab nukaraSe. - hadab Rodob xan Vwa bugeb& — an hiqanila jiabiRegi nukaraS faxiweFaSda. - hab dir Zeferab \amida xan ras batanigi, hedifan Vwa bugo Rodob, helda dur ?ak;i Koleb batani, riJe duCago, yan Dawab punila helda dandegi faxiweFaS. behanila heb Dawabgi nukaraSe. - hanDe duCa bice bi?un yasaRe wopulew xi ?iwali& - yan hiqanila ;ab~abiRegi nukaraS. - heb duCa reTun bugeb reTelgi, ban bugeb yaraGgi, Gorp rejun bugeb xugi di]e pe, - yan abunila, {al ]ubaw nukaraSda rajalda bugeb Do biZiRe `uharaw faxiweFaS, - hebme{alda diCa biFiRabila duda yasaRe wopulew xi kinaw wujunewali. [isanila heR reTelgi, banila faxiweFaS nukaraSul yaraGgi, wa[anila hew nukaraSul xodegi, cingi «yasaRe hadinaw xi wopula!» yangi a\un, pabun xoda Valgun, «duye qo-me{ 'ij!» - ilan nukaraSdagi abun, bu]iRabunila faxiweFaS roqobe. weFaSul \ul-\ularab Zeferab \amagi Cebe qoTun, {anaSu]e TadwuSun nukargi anila. faxiweFaSulgi Dindirgogi Karab heS {anaSda bicanila. hebme{alda {anaS heSda abunila - zalfade gureb doS, mun ?iwan hiqarab me{a', dun co xi wugilan dob mafardago abun bujarab. Do'ul mafna bujana, dun wugo co xiyaSda dande xi aburab mafna, - yan.
- Къайицадахъал | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
КЪАЙИЦАДАХЪАЛ РукӀанила, рукӀинчӀила цо Церги, Циги, БацІги. Къайицадахъаллъун рукӀун, гьезул бекьаризе цо гамушги букӀанила. Кутнада гьадаб гамушги бан, МукӀучихханассул ракьалда рекьарулел рукӀанила ихдал гьел. Рекьи лӏугӀараб меххалълъ квинеян абун, гьез цо хъаба нахулги, цо хъаба гьацӀцӏулги, цо хъаба урбадулги танила рохьоб жидерго къавуда баххчун. Рокъор ругел цӏцӏорорагӏаз рахӀат хвезабун букӀанила Царал. Гьабизе хӀила ургъулаго, кӀиго-лъабгониги къо банила гьалълъ. Цо къоялълъ, тӀадран рекьарулаго, гьезда асскӀоссан цо чи унев вукӀанила, ахӀулаго кечІгун, гьазухъги валагьулаго. Цицца гьикъанила: - Ялъачи, гьадав чиго щибизе ахІдолев, - ан. Дун инагури цӀеххезе гьабсагӀатанги абун, бортун анила Цер. Ццевесса чиги тӀерхьанила, ххадуб Церги тӀагӀанила. Цо заманалдассан баккун бачӀанила Цер, бигьа гьабун, цӀакъ ургъелги ккун. - Щиб лӏугьараб, щай ургъел чІвараб? - ан гьикъанила Цицца. - Лӏугьараб жони нилӏ киналго роххизе гӀадинаб буго, диде тӀадени ккараб намус буго кӀудияб, - ан жаваб гьабунила Царацца. - ВахІ, нилӏ киналго роххулеб, мун пашманлъулеб жо щиб гьеб, - ан абунила БацӀицца. - Нилӏер гьав Мукучихханассе вас гьавун вугин абун, роххел бицине витIун вукӀун вуго гьадав чи, гьев васассда цӀцӏар лъезе дунги ахӀулеб буго. Гьанже, гьессда лъезе цӀцӏар батуларого, дир яхӀ хун буго. Лъаларо, инего инчӀогойищ чӀчӏелебали, - ян жаваб кьунила гьелълъ. - Воре, воре, инчӀого бегьиларо; гъоссул ракьги бекьун, цӀцӏар лъезе ахӀараб меххалълъ, инчӀого бегьулеб жо гуро, - ян абунила БацӀиццаги Циццаги. Хьвархьвалаго анила Цер гьезда бихьулебгӀан бакӀалдассан. ГохІги бегун, хъархъазулӏе ккейгун, кӀваралълъ бекеранила гьеб. Рокъобе щварабго, Цер лӏугьанила, рагьун хъубигун, гьоцӀцӏо-нах чӏчӏикӀизе. ЛълъикӀ лъабалдаго тӀассаги чӀчӏикӀун, нахъеги щула гьарун кӀалтӀа бегун, гьелги тун, билълъанила нахъбуссун, ахӀулаго кечІгун. Гьеб тӀаде щварабго, цӀехханила Циццаги БацӀиццаги цӀцӏар щибин лъурабилан. - КӀалтӀубахъ абун лъуна, ян абунила Царацца, щибниги нечечӀого. ЦӀакъ лълъикӀаб цӀцӏар лъун бугин абун, хващтӀан рекьаризе лӏугьанила. Нахъияб къоялълъ балагьулеб букӀанила Цер рахъ-рахъалде. Вихьанила гьелда цІакъго рикӏкӀадассан унев цо чи. Валлагь, гьадав чиги дида ххадув вачӀунев чи вугоянги абун, бекеранила Цер, Циги БацІги ххадур ралагьунги тун. ГохІда нахъаги тирун, нахъбуссун бачӀанила Цер. МукӀучихханассе цоги вас гьавун рагӀула, гьессдаги цӀцӏар лъезе кколеб буго диццаян ххабар бачӀун буго хханассдассан абун, цӀакъ ине бокьуларого гӀадин, зигардизе лӏугьанила Цер. ИнчӀого бегьилароян абун, Циццаги БацӀиццаги балагьизабунила Цер. Бурбудулаго анила Цер, бокьулареб ххвелги гьабун, гохӀде нахъени щварабго, ххазабунила гьелълъ. Рокъобе щвейгун, рагьанила гьелълъ лъабабго хъабаялълъул кӀал, лӏугьанила чӀчӏикӀаризе. Танкан бакьулӏалдассаги эххе ккезарунила хъуби. АхӀулаго кечӀгун, билълъанила гьеб бигьа гьабун къайцадахъазде асскӀобе. ТӀаде щвейгун, гьез цӀехханила гьелда цӀцӏар щибин лъурабилан. - Бакьхен абун лъуна, - ян жаваб гьабунила гьелълъ. Лъабабилеб нухалълъ анила Цер, гьадавго МукӀучихханассул васассул багьанаги бачун. Лъабабилеб нухалълъ Царацца лъабабго хъаба бацІцӀад гьабун гӀодоб лъунила. Нахъбуссун бачӀун, къайцадахъаз щиб цӀцӏар лъурабилан, цӀеххараб меххалълъ, абунила гьелълъ хханассул васассда цӀцӏар ТӀагӀен абун лъунин. Рекьиги лӏугӀун, паракъалъун, рилълъанила гьел рокъоре. Цидаги БацӀидаги ракӀалда бугила, гӀодобе биччан ракӀгин, гьоцІцӏо-нах, урба чӀчӏикӀизе, киндай гьеб хӀилаялдасса чӀвачӀого борчӀилебан, Царада ракӀалдаги бугила. Щванила рокъоре, росанила ццере хъуби, ругила чӀан-чӀорого! Квалквадулел гъол рукӀаго, Царацца тӀурун биччан танила. Ххадур ралагьун къайцадахъалги ххутӀанила. qayicada]al rujanila, rujinzila co cergi, cigi, bavgi. qayicada]al;un rujun, heRul bepariRe co gamu/gi bujanila. kutnada hadab gamu/gi ban, mujuxi{anaSul rapalda reparulel rujanila i[dal hel. reji `ufarab me{a' kwineyan abun, heR co ]aba nahulgi, co ]aba haVulgi, co ]aba urbadulgi tanila roFob Didergo qawuda ba{xun. roqor rugel VororafaR ra\at [weRabun bujanila caral. habiRe \ila urGulago, jigo-;abgonigi qo banila ha'. co qoya', Tadran reparulago, heRda aSjoSan co xi unew wujanila, a\ulago kezgun, haRu]gi walahulago. ciCa hiqanila - ya;axi, hadaw xigo ?ibiRe a\dolew, - an. dun inaguri ve{eRe habsafatangi abun, bortun anila cer. CeweSa xigi TerFanila, {adub cergi Tafanila. co RamanaldaSan baKun bazanila cer, biha habun, vaq urGelgi Kun. - ?ib `uharab, ?ay urGel zwarab& - an hiqanila ciCa. - `uharab Doni ni` kinalgo ro{iRe fadinab bugo, dide Tadeni Karab namus bugo judiyab, - an Dawab habunila caraCa. - wa\, ni` kinalgo ro{uleb, mun <a/man;uleb Do ?ib heb, - an abunila baviCa. - ni`er haw mukuxi{anaSe was hawun wugin abun, ro{el bicine wiTun wujun wugo hadaw xi, hew wasaSda Var ;eRe dungi a\uleb bugo. hanDe, heSda ;eRe Var batularogo, dir ya\ [un bugo. ;alaro, inego inzogoyi? Zelebali, - yan Dawab punila he'. - wore, wore, inzogo behilaro, GoSul rapgi bepun, Var ;eRe a\arab me{a', inzogo behuleb Do guro, - yan abunila baviCagi ciCagi. FwarFwalago anila cer heRda biFulebfan bajaldaSan. go\gi begun, ]ar]aRu`e Keygun, jwara' bekeranila heb. roqobe ?warabgo, cer `uhanila, rahun ]ubigun, hoVo-na[ ZijiRe. 'ij ;abaldago TaSagi Zijun, na]egi ?ula harun jalTa begun, helgi tun, bi'anila na]buSun, a\ulago kezgun. heb Tade ?warabgo, ve{anila ciCagi baviCagi Var ?ibin ;urabilan. - jalTuba] abun ;una, yan abunila caraCa, ?ibnigi nexezogo. vaq 'ijab Var ;un bugin abun, [wa?Tan repariRe `uhanila. na]iyab qoya' balahuleb bujanila cer ra]-ra]alde. wiFanila helda vaqgo riJadaSan unew co xi. walah, hadaw xigi dida {aduw wazunew xi wugoyangi abun, bekeranila cer, cigi bavgi {adur ralahungi tun. go\da na]agi tirun, na]buSun bazanila cer. mujuxi{anaSe cogi was hawun rafula, heSdagi Var ;eRe Koleb bugo diCayan {abar bazun bugo {anaSdaSan abun, vaq ine bopularogo fadin, RigardiRe `uhanila cer. inzogo behilaroyan abun, ciCagi baviCagi balahiRabunila cer. burbudulago anila cer, bopulareb {welgi habun, go\de na]eni ?warabgo, {aRabunila he'. roqobe ?weygun, rafanila he' ;ababgo ]abaya'ul jal, `uhanila ZijariRe. tankan bapu`aldaSagi e{e KeRarunila ]ubi. a\ulago kezgun, bi'anila heb biha habun qayicada]aRde aSjobe. Tade ?weygun, heR ve{anila helda Var ?ibin ;urabilan. - baphen abun ;una, - yan Dawab habunila he'. ;ab~abileb nu[a' anila cer, hadawgo mujuxi{anaSul wasaSul bahanagi baxun. ;ab~abileb nu[a' caraCa ;ababgo ]aba baVad habun fodob ;unila. na]buSun bazun, qayicada]aR ?ib Var ;urabilan, ve{arab me{a', abunila he' {anaSul wasaSda Var Tafen abun ;unin. repigi `ufun, <araqa;un, ri'anila hel roqore. cidagi bavidagi rajalda bugila, fodobe biXan rajgin, hoVo-na[, urba ZijiRe, kinday heb \ilayaldaSa zwazogo borzileban, carada rajaldagi bugila. ?wanila roqore, rosanila Cere ]ubi, rugila zan-zorogo! kwalkwadulel Gol rujago, caraCa Turun biXan tanila. {adur ralahun qayicada]algi {uTanila.
- Хӏамаги бацӏги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Хӏамаги бацӏги Ххасало гьирал раччун, гьодги ччукӏун, хьалбаздасса расги хӏулун, цо хераб Хӏама ихдал гӏурччин ххарда кваналеб букӏанила. Хуриб ххер кун, лъарахъ лълъим гьекъон, бакъ бухӏидал, рохьобе лӏугьун, гьогьомидал, сагаялда кванан, бокьараб хӏалалда букӏанила. Гьанже дидасса лълъикӏаб хӏалалда дунялалда щибго гьечӏилан, ракӏалдаги букӏанила гьелда. Цо къоялълъ Хӏама лълъим гьекъезе лъарахъе бачӏанила. Маргъал гӏадаб чабххидассан, таххта гӏадин кӏургӏун чваххулеб лълъадал каркариялълъулги, сасараб гьороцца гьулчулеб ралъад гӏадин, цояб рахъалде чваххун унеб рохьил ващиялълъулги гьайбатаб бакъан букӏанила. Лълъим гьекъолеб Хӏамида тӏадеххуниссан цо чвархъи рагӏанила, эххеде борхханила. Тӏасса гъоркье цо Бацӏ бачӏунеб бихьанила. Хӏамил нусабго лага букӏкӏанила, ругелниги расал рахъун чӏчӏанила. Берал чӏваркьанила, гьекъолеб букӏараб лълъим кӏалдиб кковухъе ххутӏанила, тӏуртӏудулаго, Бацӏихъ балагьанила. Бацӏицца мун гьаб бакӏалда щиб гьабулебан, гӏассияб гьаракь гьабунила. Дун гьаниб къойилго букӏуна, бетӏергьанасс ниж кидаго гьанире гъола, - ян Хӏама хӏелхӏедизе лӏугьанила. Кидагояли гьаниб ццерекъад дицца чӏвараб хӏамаги букӏун буго, ццебего лъарабани дида гьанир хӏамул рукӏунеллъи, - абун Бацӏ тӏаде-тӏаде къанила. Рухӏ мукъулукъиде бахъараблъи бичӏчӏун, хераб Хӏамицца Бацӏие батӏияб наку бачанила. Гуккун, батӏа гьабун гурони, жиндир богӏолабазукьа Бацӏ хӏинкъулареблъи лъарабго, гьелълъ гьадинал жал рицанила: Гьай пакъир, Бацӏ, цӏакъ бакъун батила мун. Чохӏоцца хвараб, баккизе би гуреб, чӏурхӏараб къехь гӏадаб дир гьодал хъарссунилан, мун гӏорцӏцӏиларо. Хераб гвадаралдасса дуе гьан гьуинал, рахь рекӏарал кӏуртул лълъикӏ. Дир рокъор ругел кӏуртул кванай. Гьел ункъго руго дир. Гьезул цоялда цӏцӏар Гӏебсса, цогиялда цӏцӏар Ххаласса, лъабабилеб Лъараб, ункъабилеб цӏцӏар Лъачӏеб буго. Дун чӏчӏолеб бакӏ гӏемер рикӏкӏад гьечӏо. Гьадале, гьадаб бакӏалда буго. Къасси бачӏа, къан ккун дуего бокьараб кьела, - ян гаргаданила Хӏама. Бацӏида ракӏалде кканила: абухъего, рахь рекӏараб кӏертги щолаго, дие цӏцӏацӏцӏазе аб хераб болъонго щай къваригӏараб абун. Лълъикӏаб жоялде ургъанин мунилан абун, Хӏамие баркалаги кьун, Бацӏ цо рахъалдеххун балагьун анила. Хӏама квана-гьекъон, параххат букӏанила. Бацӏги, кидадай къасси мехх щвела, сордо бачӏинаян, кӏартиде бугеб ххиялалълъ хьуликъвачӏа бихъулеб хӏалалда букӏанила. Роол къо анила, бакъанил гӏуж щванила. Хӏама, рокъобеги билълъун, щула гьабун, рахан нуцӏцӏагун, парахханила. Къасси, чи кьижараб, гӏадамассул чӏинхъи гьечӏеб гӏужалълъ, Хӏамил кӏалтӏеги бачӏун, цо жо тенкезе лӏугьанила. Хӏамида лъанила Бацӏ бачӏун бугеблъи. Лъаниги, кӏалъачӏого чӏчӏанила. Аб жегиги рокъобего бачӏинчӏого бугоян, Бацӏицца “Гӏебсса!” абун ахӏанила. Хӏамицца, гӏебсса хӏосс бан бугилан абунила. Бацӏицца “Ххаласса!” абун ахӏанила. Хӏамицца, ххаласса къоно тӏамун бугилан абунила. Бацӏицца “Лъараб!” абун ахӏанила. Хӏамицца, лъарабани, лъарахъго чӏвалаанилан абунила. Бацӏицца “Лъачӏеб” абун ахӏанила. Хӏамиццаги, лъачӏелълъул гурищхха, рокъобеги борчӏун, Хӏама параххат бугебилан жаваб кьунила. Бацӏ, гьабилеб жоги тӏагӏун, цӏакъ-цӏакъ тенкезе, нуцӏцӏа гъуризе лӏугьанила. Хӏама гьагӏданила, чӏичӏиданила, рахъун бетӏергьабаз Бацӏ гьородухъ босизабун анила. {asalo hiral raXun, hodgi Xujun, FalbaRdaSa rasgi \ulun, co [erab \ama i[dal furXin {arda kwanaleb bujanila. [urib {er kun, ;ara] 'im heqon, baq bu\idal, roFobe `uhun, hohomidal, sagayalda kwanan, boparab \alalda bujanila. hanDe didaSa 'ijab \alalda dunyalalda ?ibgo hezilan, rajaldagi bujanila helda. co koya' \ama 'im heqeRe ;ara]e bazanila. marGal fadab xab{idaSan, ta{ta fadin jurfun xwa{uleb 'adal karkariya'ulgi, sasarab horoCa hulxuleb ra'ad fadin, coyab ra]alde xwa{un uneb roFil wa?iya'ulgi haybatab baqan bujanila. 'im heqoleb \amida Tade{uniSan co xwar]i rafanila, e{ede bor{anila. TaSa Gorpe co bav bazuneb biFanila. \amil nusabgo laga buJanila, rugelnigi rasal ra]un Zanila. beral zwarpanila, heqoleb bujarab 'im jaldib Kowu]e {uTanila, TurTudulago, bavi] balahanila. baviCa mun hab bajalda ?ib habuleban, faSiyab harap habunila. - dun hanib qoyilgo bujuna, beTerhanaS niD kidago hanire Gola, - yan \ama \el\ediRe `uhanila. - kidagoyali hanib Cereqad diCa zwarab \amagi bujun bugo, Cebego ;arabani dida hanir \amul rujunel;i, - abun bav Tade-Tade qanila. ru\ muquluqide ba]arab;i biZun, [erab \amiCa baviye baTiyab naku baxanila. guKun, baTa habun guroni, Dindir bofolabaRupa bav \inqulareb;i ;arabgo, he' hadinal Dal ricanila - - hay <aqir, bav, vaq baqun batila mun. xo\oCa [warab, baKiRe bi gureb, zur\arab qeF fadab dir hodal ]arSunilan, mun forVilaro. [erab gwadaraldaSa duye han huinal, raF rejaral jurtul 'ij. dir roqor rugel jurtul kwanay. hel unqgo rugo dir. heRul coyalda Var febSa, cogiyalda Var {alaSa, ;ab~abileb ;arab, unq~abileb Var ;azeb bugo. dun Zoleb baj femer riJad hezo. hadale, hadab bajalda bugo. KaSi baza, qan Kun duyego boparab pela, - yan gargadanila \ama. bavida rajalde Kanila, abu]ego, raF rejarab jertgi ?olago, diye VaVaRe ab [erab bo;ongo ?ay qwarifarab abun. 'ijab Doyalde urGanin munilan abun, \amiye barkalagi pun, bav co ra]alde{un balahun anila. \ama kwana-heqon, <ara{at bujanila. bavgi, kidaday qaSi me{ ?wela, sordo bazinayan, jartide bugeb {iyala' Fuliqwaza bi]uleb \alalda bujanila. rool qo anila, baqanil fuD ?wanila. \ama, roqobegi bi'un, ?ula habun, ra[an nuVagun, <ara{anila. qaSi, xi piDarab, fadamaSul zin]i hezeb fuDa', \amil jalTegi bazun, co Do tenkeRe `uhanila. \amida ;anila bav bazun bugeb;i. ;anigi, ja;azogo Zanila. ab Degigi roqobego bazinzogo bugoyan, baviCa “febSa!” abun a\anila. \amiCa, febSa \oS ban bugilan abunila. baviCa “{alaSa!” abun a\anila. \amiCa, {alaSa qono Tamun bugilan abunila. baviCa “;arab!” abun a\anila. \amiCa, ;arabani, ;ara]go zwalaanilan abunila. baviCa “;azeb” abun a\anila. \amiCagi, ;aze'ul guri?{a, roqobegi borzun, \ama <ara{at bugebilan Dawab punila. bav, habileb Dogi Tafun, vaq-vaq tenkeRe, nuVa GuriRe `uhanila. \ama hafdanila, zizidanila, ra]un beTerhabaR bav horodu] bosiRabun anila.
- Церги мокъокъги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Церги Мокъокъги Цо букӏанила, цо букӏинчӏила, Гӏанкӏкӏ цолотӏа букӏанила, Ци болъотӏа букӏанила, Гважи, Гӏисал гьабихъеги ун, магъкьал рищулеб букӏанила. Роол гӏуж букӏанила, цӏакъ багӏарараб къоги букӏун, Цер цо ганчӏида гъоркь кьижун букӏанила. Бачӏун гьеб ганчӏида тӏад цо Мокъокъги рещтӏанила, цинги берцинал бакънал рачине лӏугьанила. Кӏудияб ганчӏил биццатаб рагӏдукь кьижун букӏараб Цер борчӏанила. Тӏаде бахъине бокьичӏого, добеххун буссанила, гьанибеххун буссанила, кинго Мокъокъицца макьу биччачӏила. Лълъикӏаб къо цониги бихьугегихха дудаян, тӏаде бахъанила, Мокъокъида ццебе гӏодобги букӏун, балагьун чӏчӏанила. Цинги Мокъокъида гьадин кӏалъанила: Ялъачи, гьеб бакъан дуда, ралагьун бералгун, бачине кӏолеб жойищ, къанщунги бачине кӏолеб жойищ? – ан. Балагьунги къанщунги – элълъул батӏалъи щиб? – ан Мокъокъицца Цер гӏад-ххочӏалълъе гьабунила. Тамашахха, батӏалъи букӏунареб батани, - ян, Царацца бетӏер хьвагӏанила. Гьедин батани, бачинищхха, - ян, тӏир-тӏирун бералги къанщун, бакъаналде байбихьанила. Къанщун дуцца гьеб тӏадеги лълъикӏ бачунеб буго, - ян, Цер асскӏобе гӏагарлъанила. Цойидассан тӏадеги кӏанцӏун, Царацца Мокъокъ кӏалдибе босанила. Мокъокъида бичӏчӏанила жиб Царацца квеш маххссараде ккураблъи. Цо сабабгӏаги ккелародаян, царада гьадин абунила: Унго, Цер, Дур хӏалихьалъи, гьадигӏан берщинаб дун гьедигӏан бигьаго кодобе щвараб меххалълъ, Аллагьассе щукругӏагийищхха гьабулареб! – ан. Мокъокъил гьеб рагӏи битӏараб бугилан Цер, алхӏамдулиллагь, щукруян абулеб букӏанила. Парххан боржун Мокъокъ, дандбитӏараб цоги ганчӏида тӏадги чӏчӏун, Царае квешезего бакъан бачине лӏугьанила. Ххадуб балагьун ххутӏун, Царацца абунила, кигӏан чара тӏагӏараб меххалълъцин кӏалъани, кӏал цӏцӏорогихха диран. Данде Мокъокъиццаги жаваб кьунила, кьижизе гӏащикълъараб меххалълъцин данде къани, чарчурал берал дирги рахъагиххаян. cergi moqoqgi co bujanila, co bujinzila, fanJ coloTa bujanila, ci bo;oTa bujanila, gwaDi, fisal habi]egi un, maGpal ri?uleb bujanila. rool fuD bujanila, vaq bafararab qogi bujun, cer co ganzida Gorp piDun bujanila. bazun heb ganzida Tad co moqoqgi re?Tanila, cingi bercinal baqnal raxine `uhanila. judiyab ganzil biCatab rafdup piDun bujarab cer borzanila. Tade ba]ine bopizogo, dobe{un buSanila, hanibe{un buSanila, kingo moqoqiCa mapu biXazila. 'ijab qo conigi biFugegi{a dudayan, Tade ba]anila, moqoqida Cebe fodobgi bujun, balahun Zanila. cingi moqoqida hadin ja;anila ya;axi, heb baqan duda, ralahun beralgun, baxine joleb Doyi?, qan?ungi baxine joleb Doyi?& – an. balahungi qan?ungi – e'ul baTa;i ?ib& – an moqoqiCa cer fad-{oza'e habunila. tama/a{a, baTa;i bujunareb batani, - yan, caraCa beTer Fwafanila. hedin batani, baxini?{a, - yan, Tir-Tirun beralgi qan?un, baqanalde baybiFanila. qan?un duCa heb Tadegi 'ij baxuneb bugo, - yan, cer aSjobe fagar;anila. coyidaSan Tadegi janvun, caraCa moqoq jaldibe bosanila. moqoqida biZanila Dib caraCa kwe/ ma{Sarade Kurab;i. co sababfagi Kelarodayan, carada hadin abunila - ungo, cer, dur \aliFa;i, hadifan bercinab dun hedifan bihago kodobe ?warab me{a', alahaSe ?ukrufagiyi?{a habulareb! – an. moqoqil heb rafi biTarab bugilan cer, al\amdulilah, ?ukruyan abuleb bujanila. <ar{an borDun moqoq, dandbiTarab cogi ganzida Tadgi Zun, caraye kwe/eRego baqan baxine `uhanila. {adub balahun {uTun, caraCa abunila, kifan xara Tafarab me{a'cin ja;ani, jal Vorogi{a diran. dande moqoqiCagi Dawab punila, piDiRe fa?iq;arab me{a'cin dande qani, xarxural beral dirgi ra]agi{ayan.
- Бечелъи кӏваричӏо | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
БЕЧЕЛЪИ КІВАРИЧІО, МАХХЩЕЛ БОКЬИЛА ВукӀанила, вукӀинчӀила цо бечедав ххан. Гьессул цо гогьав васги вукӀанила. ЧӀчӏужу ячине гӀолев вас вукӀаго, ххан хванила. Цо заманалдассан эбел къачаданила васассе чӀчӏужу ячине. Васги кинго разилъулев вукӀинчӀила, аххиралдаги цо къоялълъ тӀохде вахун вас вукӀаго, гьессда лълъадае уней цо берцинай яс йихьанила. Хханассул васассул гьелълъухъ рокьи кканила. Васасс эбелалда абунила жиндие гьай пуланай яс ячеян. Хханзабазул гурей яс ячине эбелалълъе бокьун букӀинчӀила, кинниги вас тӏасса вичӀичӀого, гьей яс ячине хӀукму кканила. Цо къоялълъ ясалълъул эбел-инссухъе гьарун чагӀи ритӀанила. Ясалълъ абун бачӀанила гьадин: «Жиндие хханассул бечелъи къваригӀун гьечӀо, гьессул щиб маххщел бугебали лъазе бокьила», - ян. Васассул щибниги маххщел букӀинчӀила, ясалълъги цӀакъ берцинал ххаличаби рессулаанила. Хханассул васги разилъанила, гьей яс жиндие ячӀани, живги гьебго маххщелалде ругьунлъизе. Гьеб къотӀи-къаялда яс хханассул васассе ячанила. КватӀичӀого васги, ясго гӀадин, берцинал ххаличаби рессизе ругьунлъанила. Цо заманалдассан хханассул вас вахъанила къватӀиве, цинги щванила цо пуланаб шагьаралде. Вакъунги вукӀун, гьев гьеб шагьаралда цо богокӏаниве кваназе анила. Гьеб богокӏаниве жаниве вачӀарав щинав лага-черхх бугев кьарияв чи, гьенир хӀалтӀулел гӀадамаз вачун цо рокъовегун, чІвалаанила, цинги гьеб гьанал квенги гьабун, бичулаанила. Гьедин хханассул васги гьевго гӀадинав цо-кӀиго кьарияв чиги ккун, цо бецӀцӏаб рокъор жанир тӀамунила. Гьенир гьел цӀакъ лълъикӀ хьихьулел рукӀанила: гьел чІвазе кьара гьарулел рукӀанила. Гьедин моцІцӏгӀанассеб заман банила. Хханассда асскӀосса хъвезе вачун цин цояв анила, цо дагьаб меххалдассан кӀиабилевги анила. Гьанже ирга хханассул васассде щванила. Цо къоялда рачӀун жанирегун, хханассул васги вачун унев вукӀанила. Гьессда бичӏчӀанила жив чІвазе вачунев вукӀин. Гьесс гьезда цӀакъ гьаранила: - Дун чІвани, дидасса нужее гӀемер кӀудияб пайда щвеларо, нужеццани дун чІвачӀого тани, дицца нужее щибаб анкьие нус-нус кӀинус-нус туменалде ричун унел берцинал ххаличаби рессила. Нужее гьелълъул пайда цӀцӏикӀкӀун букӀина, - ян. Гьел разилъанила, хханассул васги, къваригӀунеб къайиги кьун, ххаличаби рессизе цо рокъове жаниве тӀамунила. ЛълъикӀалан заман банила хханассул васасс гьедин ххаличаби рессулев. Гьел ххаличаби, батӀи-батӀиял шагьаразде ун, ричулел рукӀанила гъол чагӀаз. Цо нухалда хханассул васасс жинццаго бессараб ххаличаялда тӀад гьадин хъванила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдасса хханассул вас, пуланав чи. Дун жанив тӀамун вуго. Дун ххвассар гьавурав чияссе гӀемераб боцӀцӏи кьезе буго», - абун. Гьелда тӀад хъвараб жо цӀакъ ххал гьабуни гурони, цӀцӏализе лъалароанила. Гьеб тӀад жо хъвараб ххаличаги цогидал ххаличабиги ричизе росун анила цо пуланаб шагьаралде. Гьеб шагьар букӀанила гъов хханассул васассул ватӀан. Гьеб бичун босанила гъов богокӏанив жанив тӀамун вугев хханассул васассул мадугьаласс. Гьеб, тӀад жо хъвараб ххалича цогидаздасса цӀакъго берцинабги букӀанила. Мадугьаласс босараб гьеб ххаличаялълъул ххабар рагӀун, гъов хханассул васассул чӀчӏужу анила гьеб бихьизе. Гьелълъие гьеб ххалича цӀакъ бокьанила, гьелълъухъ битӀахъе ракӀ бахъун анила. Гьелълъ мадугьалассда гьаранила, жиндиеги гьединаб ххалича бессизе бокьун бугин, гьелълъухъ балагьизе цо-кӀиго къоялълъ жиндихъе кьеян. Мадугьалассги кьун анила. Мадугьалассул ххаличаялълъухъги балагьун, гьелда релълъараб ххалича бессулей йикӀанила хханассул васассул чӀчӏужу. Цо заманалдассан хханассул нусалда лъанила гьеб ххаличаялда тӀад хъвай-хъвагӀай гьабун букӀин. Гьелълъ гьел хӀарпал дандранила, гьадинги цІцӏаланила: «Дун вуго пуланаб шагьаралдасса хханассул вас. Дун гьаб пуланаб шагьаралда гьадинаб богокӏанив жанив тӀамун вуго. Дун ххвассар гьавурав чияссе дицца гӀемераб боцӀцӏи кьела», - ян. ГьебсагӀаталълъ ясалълъ хӀадурлъи гьабунила россассда ххадуй ине. Кинабго аскар бакӀаранила, цинги кире рачунел ругелали гьездаги бицинчӀого, гьел гъоб шагьаралде ралагьун къватӀире рахъанила. Чанго къоялдассан яс гьение щванила. Цо азбаралълъур чуял, гьакалги тун, гьел гъоб богокӏанире анила. Ясалълъ киналго богогьанал, ццере хӀалтӀулел чагӀи, богокӏаналълъул бетӀергьан жиндихъего ахӀанила, цинги цояссда гьикъанила гьадинав чи кив вугевилан. Гьесс лъаларилан абунила. ГьебсагӀат гьессул бетӀер къотӀанила, цогияссда цӀехханила, гьессги лъаларилан абунила. Гьессулги бетӀер къотӀун рехханила. Лъабабизе цӀеххарав богокӏаналълъул бетӀергьан вукӀанила. ЧІваялдасса хӀинкъун, гьев гьардезе лӏугьанила: - Гьев нужецца абулев чи гьанив вуго, гьессие щибго лӏугьараб жоги гьечӀо, дун чІваге, ян. Гьесс хханассул вас вугеб бакӀ бихьизабунила. Хханассул васги ххвассар гьавун, богокӏаналълъул бетӀергьанги чІван, гьелги рокъоре тӀадруссанила. Гьеб меххалда бичӀчӀанила хханассул васассда бищунго кӀудияб бечелъи инсанассул жиндирго маххщел букӀин. bexe;i jwarizo, ma{?el bopila wujanila, wujinzila co bexedaw {an. heSul co gohaw wasgi wujanila. ZuDu yaxine folew was wujago, {an [wanila. co RamanaldaSa ebel qazadanila wasaSe ZuDu yaxine. wasgi kingo raRi;ulew wujinzila, a{iralda co qoya' To[de wa[un was wujago, heSda 'adaye uney co bercinay yas yiFanila. {anaSul wasaSul he'u] ropi Kanila. wasaS ebelalda abunila Dindiye hay <ulanay yas yaxeyan. {anRabaRul gurey yas yaxine ebela'e bopun bujinzila, kinnigi was TaSa wizizogo, hey yas yaxine \ukmu Kanila. co qoya' yasa'ul ebel-inSu]e harun xafi riTanila. yasa' abun bazanila hadin - «Dindiye {anaSul bexe;i qwarifun hezo, heSul ?ib ma{?el bugebali ;aRe bopila», - yan. wasaSul ?ibnigi ma{?el bujinzila, yasa'gi vaq bercinal {alixabi reSulaanila. {anaSul wasgi raRi;anila, hey yas Dindiye yazani, Diwgi hebgo ma{?elalde ruhun;iRe. heb qoTi-qayalda yas {anaSul wasaSe yaxanila. kwaTizogo wasgi, yasgo fadin, bercinal {alixabi reSiRe ruhun;anila. co RamanaldaSan {anaSul was wa]anila qwaTiwe, cingi ?wanila co <ulanab /aharalde. waqungi wujun, hew heb /aharalda co bogojaniwe kwanaRe anila. heb bogojaniwe Daniwe wazaraw ?inaw laga-xer{ bugew pariyaw xi, henir \alTulel fadamaR waxun co roqowegun, zwalaanila, cingi heb hanal kwengi habun, bixulaanila. hedin {anaSul wasgi hewgo fadinaw co-jigo pariyaw xigi Kun, co beVab roqor Danir Tamunila. henir hel vaq 'ij FiFulel rujanila, hel zwaRe para harulel rujanila. hedin moVfanaSeb Raman banila. {anaSda aSjoSa ]weRe waxun cin coyaw anila, co dahab me{aldaSan jiabilewgi anila. hanDe irga {anaSul wasaSde ?wanila. co qoyalda razun Daniregun, {anaSul wasgi waxun unew wujanila. heSda biZanila Diw zwaRe waxunew wujin. heS heRda vaq haranila - Dun zwani, didaSa nuDeye femer judiyab <ayda ?welaro, nuDeCani dun zwazogo tani, diCa nuDeye ?ibab anpiye nus-nus jinus-nus tumenalde rixun unel bercinal {alixabi reSila. nuDeye he'ul <ayda ViJun bujina, - yan. hel raRi;anila, {anaSul wasgi, qwarifuneb qayigi pun, {alixabi reSiRe co roqowe Daniwe Tamunila. 'ijalan Raman banila {anaSul wasaS hedin {alixabi reSulew. hel {alixabi, baTi-baTiyal /aharaRde un, rixulel rujanila Gol xafaR. co nu[alda {anaSul wasaS DinCago beSarab {alixayalda Tad hadin ]wanila - «dun wugo <ulanab /aharaldaSa {anaSul was, <ulanaw xi. dun Daniw Tamun wugo. dun {waSar hawuraw xiyaSe femerab boCi peRe bugo», - abun. helda Tad ]warab Do vaq {al habuni guroni, ValiRe ;alaroanila. heb Tad Do ]warab {alixagi cogidal {alixabigi rixiRe rosun anila co <ulanab /aharalde. heb /ahar bujanila Gow {anaSul wasaSul waTan. heb bixun bosanila Gow bogojaniw Daniw Tamun wugew {anaSul wasaSul maduhalaS. heb, Tad Do ]warab {alixa cogidaRdaSa vaqgo bercinabgi bujanila. maduhalaS bosarab heb {alixaya'ul {abar rafun, Gow {anaSul wasaSul ZuDu anila heb biFiRe. he'iye heb {alixa vaq bopanila, he'u] biTa]e raj ba]un anila. he; maduhalaSda haranila, Dindiyegi hedinab {alixa beSiRe bopun bugin, he'u] balahiRe co-jigo qoya' Dindi]e peyan. maduhalaSgi pun anila. maduhalaSul {alixaya'u]gi balahun, helda re'arab {alixa beSuley yijanila {anaSul wasaSul ZuDu. co RamanaldaSan {anaSul nusalda ;anila heb {alixayalda Tad ]way-]wafay habun bujin. he' hel \ar<al dandranila, hadingi Valanila - «dun wugo <ulanab /aharaldaSa {anaSul was. dun hab <ulanab /aharalda hadinab bogojaniw Daniw Tamun wugo. dun {waSar hawuraw xiyaSe diCa femerab boVi pela», - yan. hebsafata' yasa' \adur;i habunila roSaSda {aduy ine. kinabgo askar bajaranila, cingi kire raxunel rugelali heRdagi bicinzogo, hel Gob /aharalde ralahun qwaTire ra]anila. xango qoyaldaSan yas heniye ?wanila. co aRbara'ur xuyal, hakalgi tun, hel Gob bogojanire anila. yasa' kinalgo bogohanal, Cere \alTulel xafi, bogojana'ul beTerhan Dindi]ego a\anila, cingi coyaSda hiqanila hadinaw xi kiw wugewilan. heS ;alarilan abunila. hebsafat heSul beTer qoTanila, cogiyaSda ve{anila, heSgi ;alarilan abunila. heSulgi beTer qoTun re{anila. ;ab~abiRe ve{araw bogojana'ul beTerhan wujanila. zwayaldaSa \inqun, hew hardeRe `uhanila - hew nuDeCa abulew xi haniw wugo, heSiye ?ibgo `uharab Dogi hezo, dun zwage, yan. heS {anaSul was wugeb baj biFiRabunila. {anaSul wasgi {waSar hawun, bogojana'ul beTerhangi zwan, helgi roqore TadruSanila. heb me{alda biZanila {anaSul wasaSda bi?ungo judiyab bexe;i insanaSul Dindirgo ma{?el bujin.
- Зарул багьа | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ЗАРУЛ БАГЬА Мала Нассрудинидаги цо пуланав чияссдаги гьоркьоб цо щибго гуреб жоялдассан дагӀба-рагӀи кканила. Аххиралдаги дагӀбадуласс Мала Нассрудинида зар кьабунила. ГьебсагӀаталдаго гьоркьоре масслихӀаталълъе чагӀиги речӀчӀун, Мала Нассрудинихъе кьабизеги щвечӀого, гьел ратӀа гьарунила. Жинда кьабураб зарги цӀакъ захІмалъун, Мала Нассрудиницца гъов дандияв диваналде кьунила. Цо пуланаб къоялълъ диванбегасс гьел кӀиялго ахӀанила, гьезда гьоркьобги ккараб жо цӀехханила. Мала Нассрудиницца абунила: - Гьасс дир магӀарзукъалазулӏ зар кьабуна. Гьединлъидал гьассдасса кколеб мухь дие бахъун кьеян гьарула дицца дуда, - ян. Гъов Мала Нассрудинида зар кьабурав чи диванбегил гьудул вукӀанила, гьединлъидал диванбегие бокьанила гъов ххвассар гьавизе. Гьесс абунила цохӀо нухалда кьабураб заруда тӀассалӏугьун тезе бегьуларищан. Мала Нассрудин разилъичӀила. Гьебмеххалълъ диванбегицца абунила: - Гьедин батани, гьассдассан дуе цо гӀабаси гӀарац ккола, - ян. Гъов чиясс жиндихъ гӀарац гьечӀин, гьеб босизе, рокъове виччаян абунила. Диванбегиццаги гьев рокъове виччанила, тӀокӀав гьанивеги вачӀунгеян абураб жо бичӀчӀизабунила. ГӀарац босизе арав чи вачӀинегӀан Мала Нассрудин балагьанила цо сагӀаталълъ, кӀиго сагӀаталълъ. Аххиралдаги гьессда бичІчӀанила дов чи гьениве тӀадвуссун тӏокӀав вачӏунаревлъи. Диванбегицца жиндие гьабураб жоги бичӏчӀун, Мала Нассрудиницца гьессда гьикъанила: - БетӀерчӀахъаяв диванбег, къануналда рекъон, магӀарзукъалазулӏ зар кьабурав чияссдасса цо гӀабасийищхха кколеб? - ан. - У, - ян жаваб кьунила диванбегицца. ЛълъикІго ссверизеги гьабун, диванбегил магӀарзукъалазулӏ зар щвезабунила Мала Нассрудиницца, цинги гьессда абунила: - Дов, гӀабаси босизе рокъове арав чи вачӀинегӀан гьанив чӀчӏезе дир заман гьечӀо. Дов вачӀараб меххалда, доб дие кколеб гӀабаси дуего босе, - ян. Rarul baha mala naSrudinidagi co <ulanaw xiyaSdagi horpob co ?ibgo gureb DoyaldaSan dafba-rafi Kanila. a{iraldagi dafbadulaS mala naSrudinida Rar pabunila. hebsafataldago horpore maSli\ata'e xafigi reZun, mala naSrudini]e pabiRegi ?wezogo, hel raTa harunila. Dinda paburab Rargi vaq Ra\ma;un, mala naSrudiniCa Gow dandiyaw diwanalde punila. co <ulanab qoya' diwanbegaS hel jiyalgo a\anila, heRda horpobgi Karab Do ve{anila. mala naSrudiniCa abunila - haS dir mafarRuqalaRu` Rar pabuna. hedin;idal haSdaSa Koleb muF diye ba]un peyan harula diCa duda, - yan. Gow mala naSrudinida Rar paburaw xi diwanbegil hudul wujanila, hedin;idal diwanbegiye bopanila Gow {waSar hawiRe. heS abunila co\o nu[alda paburab Raruda TaSa`uhun teRe behulari?an. mala naSrudin raRi;izila. hebme{a' diwanbegiCa abunila - hedin batani, haSdaSan duye co fabasi farac Kola, - yan. Gow xiyaS Dindi] farac hezin, heb bosiRe, roqowe wiXayan abunila. diwanbegiCagi hew roqowe wiXanila, Tojaw haniwegi wazungeyan aburab Do biZiRabunila. farac bosiRe araw xi wazinefan mala naSrudin balahanila co safata', jigo safata'. a{iraldagi heSda biZanila dow xi heniwe TadwuSun Tojaw wazunarew;i. diwanbegiCa Dindiye haburab Dogi biZun, mala naSrudiniCa heSda hiqanila - beTerza]ayaw diwanbeg, qanunalda reqon, mafarRuqalaRu` Rar paburaw xiyaSdaSa co fabasiyi?{a Koleb& - an. - u, - yan Dawab punila diwanbegiCa. 'ijgo SweriRegi habun, diwanbegil mafarRuqalaRu` Rar ?weRabunila mala naSrudiniCa, cingi heSda abunila - dow, fabasi bosiRe roqowe araw xi wazinefan haniw ZeRe dir Raman hezo. dow wazarab me{alda, dob diye Koleb fabasi duyego bose, - yan.
- Батараб ххазина | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
РОССАССДА БАТАРАБ ХХАЗИНА PукӀанила, рукӀинчӀила россги чӀчӏужуги. Цо къоялълъ росс жиндирго биххараб рукъалълъул кьучӏчӏ буххулев вукӀанила. Гьениб гьессда месед-гӀарцул кьабун цӀураб щагӀил хъаба батанила. Гьесс гьеб лълъадухъе цӀунизе кьунила. Гьеб хъабаги чи щаклъулареб гӀадаб бакӀалда баххчун, хъаба букӀараб бакӀалдасса ганчӀалги нахъе ран, чӀчӏужуялълъ гьениб цо чанго ччугӀа баххчанила. Цинги нахъеги гьебго бакӀ бухъейин, цоги щиб бугониги батизе бегьулин россассда гьаранила. ЧӀчӏужуялълъ абухъего, гьениб чанго ччугӀаги батанила россассда. Нахъияб къоялълъ хъахӀлъи балеб заманалълъ яхъун, чӀчӏужуялълъ тӀохдасса гӀебеде бек-бекун бан, бахъухъ щущазабунила, ворчӀизеги гьавун, россассдаги лъазабунила: Ххеххго тӀаде вахъа! Нолӏ бахъухъалълъул цӀцӏад бан буго. ГӀедегӀил гьабе нахъе бакӀаризе! - ян. ГӀажаиблъарав россасс, чӀчӏужугун цадахъ лӏугьун, бакӀарун бахъухъ рокъобе босанила. Цо нухалълъ россасс ракӀалдаго гьечӀого жинда батараб месед-гӀарцул цӀураб хъабил хӀакъалълъулӏ годекӀаниб бицен гьабунила. Гьеб ххабар ххеххго хханассухъе щванила. Хханасс, жиндихъегоги ахӀун, гьессие гӀазаб кьезе байбихьанила ххазина батанищали бицеян. Аххирги гьеб батиялълъе мукӀурлъизе кканила гьев. ЧӀчӏужуялълъин абуни, жинда лъалеб жо гурин гьебилан, тӀубанго инкар гьабунила, россассул анищал ругин, гьединаб ххазинаги батун, бечелъизе ххиял бугин гьессулан. Ххассго гьаб аххираб заманалда гьединал жалазул гӀемерал ххиялал гьарун, бетӀер ссверун гӀадинцин вуго гьев, - ан абунила гьелълъ. КӀиялго, росс-лълъади асскӀореги рачун, цӀехх-рехх гьабураб меххалъги, росс тӀуванго мукӀурлъанила, цинги ххазина хханассухъе кьеян лълъадудаги лъазабунила. ЧӀчӏужуялълъин абуни, жинда бихьараб-рагӀараб жоцин гурин, букӀараб батани, кинаб гьеб букӀараб, кида дихъе гьеб баххчизе кьун букӀарабали жаваб кьеян, тӀалаб гьабунила россассдасса. Россасс гьелда ракӀалде щвезабунила, доб ххазина батараб къоялълъ ганчӀазда гьоркьоб меседил чанго ччугӀаги батанин, цинги нахъияб къоялълъ бахъухъалълъул цӀцӏадги банин. Россассул гьел рагӀабаздасса ххадув ххан рекӀеда ватанила жинцца гӀабдалзабазулгун гара-чІвари гьабулеб букӀиналда, цинги гьездаги паракъат рокъоре аян лъазабунила. Гьедин гукканила мискинчияссул чӀчӏужуялълъ ххан. roSaSda batarab {aRina rujanila, rujinzila roSgi ZuDugi. co qoya' roS Dindirgo bi{arab ruqa'ul puZ bu{ulew wujanila. henib heSda mesed-farcul pabun vurab ?afil ]aba batanila. heS heb 'adu]e vuniRe punila. heb ]abagi xi ?ak;ulareb fadab bajalda ba{chun, ]aba bujarab bajaldaSa ganzalgi na]e ran, ZuDuya' henib co xango Xufa ba{xanila. cingi na]egi hebgo baj bu]ejin, cogi ?ib bugonigi batiRe behulin roSaSda haranila. ZuDuya' abu]ego, henib xango Xufagi batanila roSaSda. na]iyab qoya' ]a\;i baleb Ramana' ya]un, ZuDuya' TohdaSa febede bek-bekun ban, ba]u] ?u?aRabunila, worziRegi hawun, roSaSdagi ;aRabunila {e{go Tade wa]a! no` ba]u]a'ul Vad ban bugo. fedefil habe na]e bajariRe! - yan. faDaib;araw roSaS, ZuDugun cada] `uhun, bajarun ba]u] roqobe bosanila. co nuha' roSaS rajaldago hezogo Dinda batarab mesed-farcul vurab ]abil \aqa'u` godejanib bicen habunila. heb {abar {e{go {anaSu]e ?wanila. {anaS, Dindi]egogi a\un, heSiye faRab peRe baybiFanila {aRina batani?ali biceyan. a{irgi heb batiya'e mujur;iRe Kanila hew. ZuDuya'in abuni, Dinda ;aleb Do gurin hebilan, Tubango inkar habunila, roSaSul ani?al rugin, hedinab {aRinagi batun, bexe;iRe {iyal bugin heSulan. {aSgo hab a{irab Ramanalda hedinal DalaRul femeral {iyalal harun, beTer Swerun fadincin wugo hew, - an abunila he'. jiyalgo, roS-'adi aSjoregi raxun, ve{-re{ haburab me{a'gi, roS Tuwango mujur;anila, cingi {aRina {anaSu]e peyan 'adudagi ;aRabunila. ZuDuya'in abuni, Dinda biFarab-rafarab Docin gurin, bujarab batani, kinab heb bujarab, kida di]e heb ba{xiRe pun bujarabali Dawab peyan, Talab habunila roSaSdaSa. roSaS helda rajalde ?weRabunila, dob {aRina batarab qoya' ganzaRda horpob mesedil xango Xufagi batanin, cingi na]iyab qoya' ba]u]a'ul Vadgi banin. roSaSul hel rafabaRdaSa {aduw {an rejeda watanila DinCa fabdalRabaRulgun gara-zwari habuleb bujinalda, cingi heRdagi <araqat roqore ayan ;aRabunila. hedin guKanila miskinxiyaSul ZuDuya' {an.
- Бахӏарчилъи бихьулищ | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ВАБАБАЙ, БАХІАРЧИЛЪИ БИХЬУЛИЩ? Кету букӀанила рагъида басандулеб. Гьеб цӀакъго гьитӀинаб, загӀипаб жо букӀанила. ГьебсагӀат баккун бачӀанила цо Гьой. Кету, кӀутӀун, цо рахъалдеххун кӀанцӀанила. КӀамури гӀадин, мугъги гьетӀизабун, расги ххучизабун, жиндирго михъалги хъитӀизарун, ххичун чӀчӏанила гьеб. Гьоян абуни, гьелълъул ххалго гьабичӀого, хьолбохъан гӀебеде анила. Гьеб нахъе ун борчӀизегӀан, Кету гьадаб ссураталда балагьун чӀчӏун букӀанила. «Балагьея дир бахӀарчилъи, дидасса Гьой хӀинкъулеб куц! Дида хъатӀарабани, бихьилаан дицца гъолълъие гьабулеб жо!», - ян абунила гьелълъ. wababay, ba\arxi;i biFuli?& ketu bujanila raGida basanduleb. heb vaqgo hiTinab, Rafi<ab Do bujanila. hebsafat baKun bazanila co hoy. ketu, juTun, co ra]alde{un janvanila. jamuri fadin, muGgi heTiRabun, rasgi {uxiRabun, Dindirgo mi]algi ]iTiRarun, {ixun Zanila heb. hoyan abuni, he'ul {algo habizogo, Folbo]an febede anila. heb na]e un borziRefan, ketu hadab Suratalda balahun Zun bujanila. «balaheya dir ba\arxi;i, didaSa hoy \inquleb kuc! dida ]aTarabani, biFilaan diCa Go'iye habuleb Do!», - yan abunila he'.
- Бацӏги, церги, циги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
БацIги, церги, циги БукIанила букIинчIила цо бацIги букIанила, цо церги букIанила, цо циги букIанила. Гьал лъабалго цадахъ хIалтIулел, цадахъ кваналел, цадахъ цо рукъор регулел гьалмагъзаби рукIанила. Гьазул цо гьацIцӏул, цо нахул, цо хьодол лъабго хъабаги букIанила. Цо къоялълъ гьал лъабалго хурир лъилъарулел рукIанила. ЦIакъ бакъ бухIараб къо букIанила. Цер, хIалтIиги чIалгIун, щиб гьабилебали лъаларого букIанила. – Ия, ия! – ян ахIтIанила цойидассан цер. – Щиб, мун хваяб, цер, дуе? – ян гьикъанила бацIиццаги циццаги. – Валлагь, хханассе вас гьавун вуго, цIцӏар лъезе дун ахIулеб буго, – ян абунила царацца – Гьедин батани, а, – ян азги биччан тун бугила. Цер битIухъе рокъобе анила. Цин гьоцIцӏо чIчӏикIун, цинги нах чIчӏикIун, ххадуб хьон чIчӏикIун лъабабго кIалукье ккезабунила. БацIцIун кIал-бергун, бигьа гьабун цер хIалтIизе бачIанила. – Щиб цIцӏар лъураб, мун хваяб, цер? – абун гьикъанила аз царада. – «КIалукье» лъуна, – янги абун, цер лъилъаризе лӏугьанила. Гара-чIварун лъилъарулел рукIаго, нахъеги цер ахIтIанила. – Ия, ия! – ян. БацIиццаги циццаги гьикъанила: – Щиб, мун хваяб цер, дуе, дуда рагIулеб щиб? – абун. – Хханассе цоги вас гьавун вуго, цIцӏар лъезе ахIулеб буго, – ян рачIчI лъунила царацца. – Ахха, щиб гьабилеб, – ан абун азги балагьизабунила. Царацца рокъобе ххазабунила. ГьацIцӏулги, нахулги, хьодолги хъуби битIун бащалъуде ккезарунила. БацIцIа-бакун кIал-бергун, цер, гьалмагъзабазде асскIобе бачIанила. – Щиб цIцӏар лъураб, мун хваяб, цер? – абун гьикъанила. – Гьанжесса «БащдакIо» лъуна, – иланги абун, цер гьалмагъзабазда цадахъ квалквалдизе лӏугьанила. – Ия, ия! – абун, цIакъго хIалакарал гьаркьал гьарунила дагьаб меххалдассан царацца. – Жакъа гьаб нажасалде бачIараб балагьго щиб, – илан, бацIги циги царахъ ралагьанила. – Валлагь гьанжеги мукъулукъ турадие вас гьавун вуго, цIцӏар лъезе инчIого гIолеб гьечIо, – илан абун, царацца ине ххиял гьабунила. – А, мун хваяб, цер, а. Къоялълъ ниж хIалтIулел, мун цIцӏарал лъолеб, – абун, азги биччан танила. – Хханасс ахIараб бакIалде инчIого, рес щибхха, – ян церги анила. Цер лъабабизеги рокъобе анила. Лъабабго хъаба лазаталда бацIцIад гьабунила. ЧIчӏикIулаго кIал-бергун, бугеб магIишаталълъул ххабаралълъе жоги течIого, гьалмагъзабазде асскIобе щванила. – Щиб цIцӏар лъураб, хваяб цер? – абун гьикъанила. – Щибхха лъелеб бетIеркъотIадида, – «БацIцIа-бак» лъун тана, – илан бицанила. ХIалтIанила, хIалтIанила, бакъани мехх щванила, цIакъ алги ссваканила, ал къогогIан ссвакараб ххвелги гьабун, церги букIанила. Дагьаб меххалълъ гIодорги чIчӏун, гара-чIварун рокъоре анила. Къассаде квание ургъулаго, къавулӏ щибго жо ххутIун гьечIеблъи лъанила. Гьоркьоб кIудияб гъалмагъир ккезе бахъанила. Дуцца кун батилилан цоял, гурила дуцца кун батилилан цоял, цоцалълъ тенколел рукIанила. Гьоркьоссаго цер масслихIаталълъе лӏугьанила. Царацца гьадинаб гIакълу кьунила: – ГьацIцӏулги, нахулги, хьодолги хъаба, цоги, кIигоги чохьониб хIебтIизе ккани, дагьаб жо гуро, киназ гьеб кун батаниги, бусада гьеб рахIатго ххутIиларо, къассаде нилӏ регун лълъикI, ххиянат киназул бугебали радал жибго лъалила. БацIидаги цидаги гьеб гIакълу битIараблъун бихьанила. Гьел лъабалго реганила. Ссвакан, тату хвараб бацIги циги кьижанила, «рачIукь жо бугеб цер» борчIун чIчӏанила. Царада квараб жо ургьиб хIехьезе кIвечIила. Бахъун тIадегун, царацца кинабго хъублъи бацIидаги цидаги баханила, жибгоги чура-ххуланила. Сордо борчIараб цер кьижун букIанила. Радалго тIадеги рахъун, дуцца кун букIун бугилан, цояб, валлагь гурин, дуцца кун букIун бугилан цояб, бацIги циги рагъулел рукIанила. Азул хъуй-хъай, гьаракь-сасалъухъе борчIизеги борчIун, царацца абунила: – Бихьулищ дицца ххиянатаб къватIиб чIвазабулеб куц, хханассул васассда цIцӏар лъезе дун араб меххалълъ нуж балъго кваналелищ рукIарал? – абун. БацIиццаги циццаги цоцазда гIемерал ругънал лъунила, тату хун, гIодор кканила. Азул хIажат хвейгун, царацца бахъун тIадегун: – БацIги циги багъана, царацца биги чIчӏикIана, – янги ахIун, лӏутун биччантанила.
- Гуккараб варани | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ВАРАНИ ГУККАРАБ КУЦ Рукӏанила, рукинчӏила, цо нохъода гьалмагълъиялда чӏчӏун, бетIербахъиялълъе цо Гъалбацӏги, Циги, Церги, Цакьуги, Гӏангурги, Гъедуги. Рукӏанила гьел, щибаб къоялълъ чанареги ун, кепалда бетӏербахъулел. Цо къоялда гьезул нохъодул рагьтӏассан гӏебеде анила варанабазул къокъа. Гьездасса цояб, хӏетӏе унтун, билълъине кIвечӏого, авлахъалда ххутӏун букӏанила. Царада бихьанила гъоб; гьеб бортун анила Гъалбацӏида бицине, гьадин цо варани ххутӏун бугин, билълъине кӏвечӏого абун. Гьанже Гъалбацӏицца гъолълъухъе битӏун буго Цер: «Мун гъолълъухъе а, щибниги ххиянатги гьабиларин, нилӏер гьалмагълъиялда чӏчӏезе бачӏаян абе», - ян. Царацца абунила Варанида: — Нижер бетӏергьанасс ахӏулеб буго мун, щибниги ххиянатги гьабиларин, цадахъ бетӏербахъиялълъе чӏчӏезе бачӏаян. РескъотIараб бакӏалде ккун бугелълъул, ун буго гьеб нохъоде Гъалбацӏихъе. Гъалбацӏицца Варанида гӏемераб ххабарги бицун буго: — Мун ххер кунеб жо буго, ниж гьан кунел жал руго, кӏиязулго данде ккеларилан ккун батила дуда. Щибниги ххияналъи гьабизе гьечӏо, воре, мун щибго хӏинкъуге, — ян. Гьедин цадахъ рукӏун руго гьал таманаб меххалълъ. Цо къоялълъ Гъалбацӏ, чанабе араб меххалълъ, Пилгун багъизе ккун, цӏакъ квеш лълъукъ-лълъукъун бачӏун буго. Чан гьабизе кӏоларого, босада бегун букӏанила. Гьелълъие квине гӏураб чан гьабизе гьездаги кӏоларого, хвезе дагьалълъ ххутӏун буго Гъалбацӏ. Гьанже Царацца абунила Гъалбацӏида: - Нилӏее гӏураб гьанги батила, гъоб Варанигӏаги чӏван лълъикӏ, - ян. Гъалбацӏ кинго разилъун гьечӏо: — Дицца рагӏи кьуна, ххиянат гьабизе гьечӏо, - ян. Нахъеги ун буго Цер, нижецца дуде гӏайиб щвезе теларо абун, кье нижее изну доб чӏвазе. Кинго кьун гьечӏо гьелълъ изну. Нахъеги, лъабабилеб нухалълъги бачӏун буго Цер Гъалбацӏихъе, нижецца гьадинаб тадбир ургъун бугила дуде щибго гӏайиб щолареб. Дицца абилин долда, нилӏ киналго ракӏарараб бакӏалдеги ахӏун: нилӏер бетӏергьан хвезехъин бугин, нилӏер умумузул гӏадат букӏанин, бо биххизабизегӏан, нусгоги хвезе кьолеб, нусгояв хвезегӏан, анцӏго хвезе кьолеб, анцӏго холев вукӏани, цояв хвезе кьолев, нилӏеда гьоркьосса цояв хвезе бегьилаян. Гьелълъие дир гӏураб хӏила бугин, мун разилъеян гьарун буго Царацца. Аххир Гъалбацӏицца абун буго, гьеб жибго разилъани, дунги рази бугин, гурони гьечӏилан. Гьанже цо къоялълъ, киналго гьалмагъзабиги ракӏарун, Царацца бицун буго жинццаго Гъалбацӏие бицараб умумузул кици. Гьебмеххалълъ Цакьуцца абун буго нужецца дун кунин, дицца дирго би хӏалал гьабилин нужейилан. Бацӏиццаги абун буго: «Мун кун, цонигияб гӏорцӏцӏуларо, гьедигӏан гьитӏинаб дур гьан чамалълъе щолеб?» Дун кунилан абун лӏугьун буго Бацӏ. Бацӏил гьан квани, ниж киналго хвеларищан, цонигияб разилъичӏила. Дун кун, дун разияб бугоян бахъанила гӏангур. Белъине кӏолареб дур гьан лълъицца кунеб, гьеб белъунаго, цӏул тӏагӏинабилин, рохьобе нухги гӏазуцца къан бугебин, тӏаде бортун, семизе лӏугьун руго Бацӏги Циги. Асскӏобе бачӏун, Вараницца абун буго: — Щай нуж рагъулел, гӏезегӏан кӏудияб къаркъалаги буго дир, гьуинаб гьанги буго дир, киназего гӏезеги гӏела, дицца дир би хӏалал гьабула нужее, дун кун, - ан. Битӏараб бугин абун, Царацца киналго тӏаде разарун, гъоб Варани, цо лахӏзаталда жаниб тӏутӏу-хъухъун рехханила. warani guKarab kuc rujanila, rujnzila, co no]oda halmaG;iyalda Zun, beTerba]iya'e co Galbavgi, cigi, cergi, capugi, fangurgi, Gedugi. rujanila hel, ?ibab qoya' xanaregi un, ke<alda beTerba]ulel. co qoyalda heRul no]odul rahTaSan febede anila waranabaRul qoqa. heRdaSa coyab, \eTe untun, bi'ine jwezogo, awla]alda {uTun bujanila. carada biFanila Gob, heb bortun anila Galbavida bicine, hadin co warani {uTun bugin, bi'ine jwezogo abun. hanDe GalbaviCa Go'u]e biTun bugo cer - «mun Go'u]e a, ?ibnigi {iyanatgi habilarin, ni`er halmaG;iyalda ZeRe bazayan abe», - yan. caraCa abunila waranida — niDer beTerhanaS a\uleb bugo mun, ?ibnigi {iyanatgi habilarin, cada] beTerba]iya'e ZeRe bazayan. resqoTarab bajalde Kun buge'ul, un bugo heb no]ode Galbavi]e. GalbaviCa waranida femerab {abargi bicun bugo — mun {er kuneb Do bugo, niD han kunel Dal rugo, jiyaRulgo dande Kelarilan Kun batila duda. ?ibnigi {iyana;i habiRe hezo, wore, mun ?ibgo \inquge, — yan. hedin cada] rujun rugo hal tamanab me{a'. co qoya' Galbav, xanabe arab me{a', <ilgun baGiRe Kun, vaq kwe/ 'uq-'uqun bazun bugo. xan habiRe jolarogo, bosada begun bujanila. he'iye kwine furab xan habiRe heRdagi jolarogo, [weRe daha' {uTun bugo Galbav. hanDe caraCa abunila Galbavida - ni`eye furab hangi batila, Gob waranifagi zwan 'ij, - yan. Galbav kingo raRi;un hezo — diCa rafi puna, {iyanat habiRe hezo, - yan. na]egi un bugo cer, niDeCa dude fayib ?weRe telaro abun, pe niDeye iRnu dob zwaRe. kingo pun hezo he' iRnu. na]egi, ;ab~abileb nu[a'gi bazun bugo cer Galbavi]e, niDeCa hadinab tadbir urGun bugila dude ?ibgo fayib ?olareb. diCa abilin dolda, ni` kinalgo rajararab bajaldegi a\un, ni`er beTerhan [weRe]in bugin, ni`er umumuRul fadat bujanin, bo bi{iRabiRefan, nusgogi [weRe poleb, nusgoyaw [weRefan, anvgo [weRe poleb, anvgo [olew wujani, coyaw [weRe polew, ni`eda horpoSa coyaw [weRe behilayan. he'iye dir furab \ila bugin, mun raRi;eyan harun bugo caraCa. a{ir GalbaviCa abun bugo, heb Dibgo raRi;ani, dungi raRi bugin, guroni hezilan. hanDe co qoya', kinalgo halmaGRabigi rajarun, caraCa bicun bugo DinCago Galbaviye bicarab umumuRul kici. hebme{a' capuCa abun bugo nuDeCa dun kunin, diCa dirgo bi \alal habilin nuDeyilan. baviCagi abun bugo - «mun kun, conigiyab forVularo, hedifan hiTinab dur han xama'e ?oleb&» dun kunilan abun `uhun bugo bav. bavil han kwani, niD kinalgo [welari?an, conigiyab raRi;izila. dun kun, dun raRiyab bugoyan ba]anila fangur. be;ine jolareb dur han 'iCa kuneb, heb be;unago, vul Tafinabilin, roFobe nu[gi faRuCa qan bugebin, Tade bortun, semiRe `uhun rugo bavgi cigi. aSjobe bazun, waraniCa abun bugo — ?ay nuD raGulel, feRefan judiyab qarqalagi bugo dir, huinab hangi bugo dir, kinaRego feRegi fela, diCa dir bi \alal habula nuDeye, dun kun, - an. biTarab bugin abun, caraCa kinalgo Tade raRarun, Gob warani, co la\Ratalda Danib TuTu-]u]un re{anila.
- Щудукӏай | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ЩУДУКІАЙ ЙикӀанила, йикӀинчӀила, ЩудукӀалълъул щуго яс йикӀанила. Цо къоялълъ ЩудукӀалълъ ясазе карщ гьабунила. Гьеб чӀчӏикӀизе гъудал ратичӀила. Пайда гьечӀилан, ЩудукӀай гъудазе цӀул къотӀизе рохьое анила. Рохьое унаго, гьелда данде кканила цо БацІ. БацІицца гьикъанила: - Кие мун уней йигей? - ан. - Дунали рохьое уней йиго. Верехха, дуцца гьадал дир лъимал квине гурин! Рахан нуцӀцӏагин таралин дицца гьел, - анги абун, ЩудукӀай рохьое ялагьун анила. Гьеб рагӀаги дир гӀиндаян, БацІ, боххиялълъ, лъабцӀцӏул кӀанцӀун, ЩудукӀалълъул рагьде щванила. - ЩудукӀалълъул щуго яс, нуцӀцӏа ричӀе, эбелхвадал! - ан ахӀанила. - Рагьиларо, мун нижер эбел гуро, нижер эбел баргъичазул килщал цӀурай, курхьабазул гъажал цӀурай йикӀана, - ян абунила ясаз. Цинги БацӀицца, рохьобеги ун, пенкьелодул курхьаби гьарунила, макъаридул баргъичал гьарунила. ТӀадбуссун лъималазул кӀалтӀе щванила. НуцӀцӏил картӀиниссан баргъичалги, курхьабиги рихьун тун ххадуб, ясаз БацІ жанибе биччан танила. Жанибе борчӀарабго, БацӀицца цо яс мокърукь яххчанила, цо яс ссанкӀида нахъа къазаюнила, цояй рохъдолӏ къазаюнила, кӀиго яс кванила. ЩудукӀалълъул гьацӀцӏул, нахул, хьодол хъуби рукӀанила, гьелги чӀчӏикӀанила. ТӀири течӀого карщги чӀчӏикӀанила, кутакалда чехьги цӀун, БацІ цо бакӀалда бегизе анила. Гьениб рахӀаталда кьижанила. ЩудукӀай рокъое юссанила: цониги яс гьечӀила. - ЩудукӀалълъул щуго яс, кир ругел, эбелхвадал! - ан ахІданила. Дун гьаний йигоян цояй ссанкӀида нахъассан ахІданила. Дун гьаний йигилан цояй мокърукьан, цояй рохъдолӏан ахІданила. КӀигояй тӀагӀун ятанила. ГӀоданила, йортанила, чӀичӀиданила, хъвагӀданила, хъерщеданила, тӀирщаданила. Карщалде йортани, карщ гьечӀила, нахуде, гьоцӀцӏоялде якканила - гьебги гьечIила. Чараги бухӀун, чуриги бухӀун ххутӀанила. БацӀие гьабизе кӀолеб щибниги жо бугебани, ясалго кІваричӀоанилан, ЩудукӀай кьвагьулей, юхӀулей йикӀанила. Щудукӏалде асскӀобе зигара гьабун Цер бачӀанила. Гьелълъ ЩудукӀалда абунила, Бацӏие хӀила жинцца гьабилин, жиндие тӀатӀулӏ ххинкӀалги гьаруни, квасул бусенги тӀамунийилан. ЩудукӀайги гьелда рекъанила. Къассаде ЩудукӀалълъ ясазеги жиндиегоги тӀатӀулӏ ххинкӀал гьарунила, Царае тӀорччол ххинкӀал гьарунила. ХхинкӀал кунеб меххалълъ, Цер ххинкӀазул лълъахь-лълъахьи бугилан зигарданила, гьеб дурго ца-кӀалалълъул чӀахӀалъиялълъул жо бугилан, ЩудукӀалълъги абунила. Регизе мехх щванила. Яхъун ЩудукӀалълъ Царае зазил бусен тӀамунила. Ясазеги жиндиегоги квас-квасул бусен тӀамунила. Цер, бусен хӀенчолеб бугилан, зигарданила. ЩудукӀалълъ гьеб дурго ракьа-гьаналълъул чӀахӀалъиялълъ бугеб жо бугилан абунила. Абухъего, гьеб гьедин батизе бегьулилан, зигара тун, Цер кьижанила. Радал Цер къватӀибе бахъанила, БацӀида ххадуб лӏугьанила. Рохьоб добе баккун, гьанибе баккун, Бацӏ балагьанила. АсскӀобе билълъун, гара-чІваранила. Гьадин-гьадинан гьоркьоб гьудул-гьалмагълъи ккезабунила, цо хъещтӀезе ун лълъикӀ гуродаян тӀаделъанила. БацІ цӀакъ букӀкӀуркӀахъданила. Чехьги цӀун букӀаго, хъещтӀезего щай абун зигарданила. Жибго бегун букӀун, Царал ххабар-кӀалалълъухъ гӀенеккун чӀчӏезе бокьун букӏанила БацӀие. Цер кинго тӀасса бичӀичӀила, хъещтӀезе бачанила. Цин рахъун чӀчӏун хъещтӀанила, гьанже гӀодор чӀчӏун хъещтӀон лълъикӀин, гьанже «мукӀусгъей» гьабун лълъикӀилан, Царацца батӀи-батӀиял къагӀидаби малълъанила. Бищун ссанагӀатаб куц ккарабго, Цер БацӀида гъоркье кӀущанила. Бацӏ цӀцӏералда рекӀун ххутӀанила. Гьебмеххалълъ Цер, - махил росе, миккил росеян ахІданила. Щудукӏай тӀилалгун, гӀурдулгун тӀаделъанила. БацӀида гӀадалӏ цо тӀил банила, магӀарзухъан цояй яс къватӀие кӀанцӀун ячӀанила, цоги банила - цоги кӀанцӀун ячӀанила. Гьагъадин балаго, хьодол, нахул, гьацӀцӏул хъуби, карщ турхьиялда къватӀире ралел рукӀанила. Ццим буссунарого, ЩудукӀай кьабулейго-кьабулей йикӀанила. БацӀиде цӀакъго хӀал кканила. Бахъун туркӀанила, цӀцӏороде кӀудияб тӀомги бахъун бачӀанила, БацІги борчӀанила. БацІ борчӀарабго, Цер лӏутанила - БацІ ххадуб бортанила. Цер цо картӀинибе борчӀун унеб букӀанила, БацӀихъе рачӏчӏ кквезе щванила гьелълъул. Царацца гьебмеххалълъ БацӀиде ахӀанила: - Дир рачІчӏ кквезе щвечӀеб жо! КӀалдиб тӀурччи ккураб жо! - ян. - Вагь! Дир кӀалдибе ккараб жо рачІчӏ гуреб, тӀурччидай, - ан, БацӀицца кӀал гьакӀкӀанила. Цер тӀубан картӀинибе борчӀанила. Квараб щинабги магӀарзухъан бачӀун, Церги кодосса борчӀун ххутӀанила БацІ. Нахъе балагьалдасса цӀунагиян, ясалги данде рачун, ЩудукӀайги танила. ?udujay yijanila, yijinzila, ?uduja'ul ?ugo yas yijanila. co qoya' ?uduja' yasaRe kar? habunila. heb ZijiRe Gudal ratizila. <ayda hezilan, ?udujay GudaRe vul qoTiRe roFoye anila. roFoye unago, helda dande Kanila co bav. baviCa hiqanila - kiye mun uney yigey& - an. - dunali roFoye uney yigo. were{a, duCa hadal dir ;imal kwine gurin! ra[an nuVagin taralin diCa hel, - angi abun, ?udujay roFoye yalahun anila. heb rafagi dir findayan, bav, bo{iya', ;abVul janvun, ?uduja'ul rahde ?wanila. - ?uduja'ul ?ugo yas, nuVa rize, ebel[wadal! - an a\anila. - rahilaro, mun niDer ebel guro, niDer ebel barGixaRul kil?al vuray, kurFabaRul GaDal vuray yijana, - yan abunila yasaR. cingi baviCa, roFobegi un, <enpelodul kurFabi harunila, maqaridul barGixal harunila. TadbuSun ;imalaRul jalTe ?wanila. nuVil karTiniSan barGixalgi, kurFabigi riFun tun {adub, yasaR bav Danibe biXan tanila. Danibe borzarabgo, baviCa co yas moqrup ya{xanila, co yas Sanjida na]a qaRayunila, coyay ro]do` qaRayunila, jigo yas kwanila. ?uduja'ul haVul, na[ul, Fodol ]ubi rujanila, helgi Zijanila. Tiri tezogo kar?gi Zijanila, kutakalda xeFgi vun, bav co bajalda begiRe anila. henib ra\atalda piDanila. ?udujay roqoye yuSanila, conigi yas hezila. - ?uduja'ul ?ugo yas, kir rugel, ebel[wadal! - an a\danila. Dun haniy yigoyan coyay Sanjida na]aSan a\danila. dun haniy yigilan coyay moqrupan, coyay ro]do`an a\danila. jigoyay Tafun yatanila. fodanila, yortanila, zizidanila, ]wafdanila, ]er?edanila, Tir?adanila. kar?alde yortani, kar? hezila, na[ude, hoVoyalde yaKanila - hebgi hezila. xaragi bu\un, xurigi bu\un {uTanila. baviye habiRe joleb ?ibnigi Do bugebani, yasalgo jwarizoanilan, ?udujay pwahuley, yu\uley yijanila. ?udujalde aSjobe Rigara habun cer bazanila. he' ?udujalda abunila, baviye \ila DinCa habilin, Dindiye TaTu` {injalgi haruni, kwasul busengi Tamuniyilan. ?udujaygi helda reqanila. qaSade ?uduja' yasaRegi Dindiyegogi TaTu` {injal harunila, caraye TorXol {injal harunila. {injal kuneb me{a', cer {injaRul 'aF-'aFi bugilan Rigardanila, heb durgo ca-jala'ul za\a;iya'ul Do bugilan, ?uduja'gi abunila. regiRe me{ ?wanila. ya]un ?uduja' caraye RaRil busen Tamunila. yasaRegi Dindiyegogi kwas-kwasul busen Tamunila. cer, busen \enxoleb bugilan, Rigardanila. ?uduja' heb durgo rapa-hana'ul za\a;iya' bugeb Do bugilan abunila. abu]ego, heb hedin batiRe behulilan, Rigara tun, cer piDanila. radal cer qwaTibe ba]anila, bavida {adub `uhanila. roFob dobe baKun, hanibe baKun, bav balahanila. aSjobe bi'un, gara-zwaranila. hadin-hadinan horpob hudul-halmaG;i KeRabunila, co ]e?TeRe un 'ij gurodayan Tade;anila. bav vaq buJurja]danila. xeFgi vun bujago, ]e?TeRego ?ay abun Rigardanila. Dibgo begun bujun, caral {abar-jala'u] feneKun ZeRe bopun bujanila baviye. cer kingo TaSa bizizila, ]e?TeRe baxanila. cin ra]un Zun ]e?Tanila, hanDe fodor Zun ]e?Ton 'ijin, hanDe «mujusGey» habun 'ijilan, caraCa baTi-baTiyal qafidabi ma'anila. bi?un Sanafatab kuc Karabgo, cer bavida Gorpe ju?anila. bav Veralda rejun {uTanila. рebme{a' cer, - ma[il rose, miKil roseyan a\danila. ?udujay Tilalgun, furdulgun Tade;anila. bavida fada` co Til banila, mafarRu]an coyay yas qwaTiye janvun yazanila, cogi banila - cogi janvun yazanila. haGadin balago, Fodol, na[ul, haVul ]ubi, kar? turFiyalda qwaTire ralel rujanila. Cim buSunarogo, ?udujay pabuleygo-pabuley yijanila. bavide vaqgo \al Kanila. ba]un turjanila, Vorode judiyab Tomgi ba]un bazanila, bavgi borzanila. bav borzarabgo, cer `utanila - bav {adub bortanila. cer co karTinibe borzun uneb bujanila, bavi]e raZ KweRe ?wanila he'ul. caraCa hebme{a' bavide a\anila - dir raZ KweRe ?wezeb Do! jaldib TurXi Kurab Do! - yan. - wa\! dir jaldibe Karab Do raZ gureb, TurXiday, - an, baviCa jal haJanila. cer Tuban karTinibe borzanila. kwarab ?inabgi mafarRu]an bazun, cergi kodoSa borzun {uTanila bav. na]e balahaldaSa vunagiyan, yasalgi dande raxun, ?udujaygi tanila.
- Гъадил тӏинчӏ | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Гъадил тӏинчӏ Гъадил цо тӏинчӏ букӏун букӏун буго гӏемерго ххирияб. Гъадицца абун буго элда, воре мун, гамачӏ босизе гӏадан гӏодове къуларавго, боржа, дудаго речӏчӏизе гурилан. Тӏанчӏицца абун буго: Гӏадан вихьарабго, боржина, - ян. Гьай цӏцӏодорил цӏцӏодор абун, разилъун, боххун, гозо кӏутӏанила эбелалълъ. Кӏутӏараб гозо квешго ккун, тӏинчӏ хун буго. Gadil Tinz Gadil co Tinz bujun bugo femergo {iriyab. GadiCa abun bugo elda, wore mun, gamaz bosiRe fadan fodowe qularawgo, borDa, dudago reZiRe gurilan. TanziCa abun bugo fadan wiFarabgo, borDina, - yan. hay Vodoril Vodor abun, raRi;un, bo{un, goRo juTanila ebela'. juTarab goRo kwe/go Kun, Tinz [un bugo.




