
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Результаты поиска
Search this site
2070 results found with an empty search
- Уцумиххан | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
УЦУМИХХАН Цо росулӏ вукӀун вуго Уцумиххан абулев ххан. Боцӏцӏи-рикъзи букӀин гурони, гьессул щибго гӀелму букӀун гьечӀо. Гьессие бищунго бокьулеб жо букӀун буго гӀадамаз жиндие рецц-бакъ гьаби. Жиндие гьабураб реццалълъухъ кьолеб жоялде гьев вачӀунев вукӀун гьечӏо. Росдал гӀадамал гьессукьа цӀакъ нахъе къалел рукӀун руго. Гьессул рекӀеда унтулеб жо гьабизе лълъиданиги кӀолеб букӀун гьечӀо. Гьесс абураб жоялде инкар гьабизе кӀолев чиги щивниги вукӀун гьечӀо. Гьединаб къадру-къиматалда вукӀинги гӀечӀого, гьессие къваригӀун буго дибир-будунасс, дугӀа-алхӀам гьабулаго, гьединго диниял гара-чІвариял гьарулаго, цогидал цӏцӏар рагӀарал гӀадамазда гъорлӏ жиндирги цӀцӏар реххссезе. Гьелдалъун гьессул мурадги букӀун буго живги, жиндир туххум-кьибилги, умумул-гӀагарлъиги гӀарабазул цӀцӏар бугеб туххумалдасса рачӀаралилан ххалкъалда рагӀизабизе. Гьединлъидал гьесс цо къоялда ххутӏба гьабизе рузманалда вахъине кколев вукӀарав мутагӀилассда абун буго жиндир цӀцӏарги цо нухалдагӀаги ххутӀбаялълъулӏ реххссеян. Гьелълъухъ, жинцца дуе кӀиго куй кьелинги абун буго. ЛълъикӀ бугилан, мутагӀилги разилъун вуго. Цо рузман къоялда гьев мутагӀил ххутӀба гьабизе вахъун вуго. Ххутӏба гӀараб мацІцӏалда гьабулеб букӀун буго. Ххутӏба гьабулаго, мутагӀиласс гӀараб мацІцӏалълъ Уцумихханассдеххун гьадин абун буго: - Я Уцумиххан! Гьединаб кӀудияб гьвелъун мун гьавурав Аллагьассе щибаб рецц буго, гьадал дур берцинал ясал мутагӀилзабазе вакъпулъун гьарурав Аллагьассе щибаб рецц буго! - ян. ГӀодов вукӀун мутагӀилассухъ гӀенеккун вукӀарав дибир цӀакъго виххун лӏугъун вуго. - Вахӏ, дуцца бицунеб щиб? - анги абун, гьев кӀанцӀун тӀаде вахъун вуго. Мажгиталъур рукӀарал гӀадамалги цоцахъ ралагьун, чІваркьун ххутӀун руго. Гьебмеххалълъ мутагӀиласс гӀараб мацІцӏалда дибирассда гьадин абун буго: - Мун вуцӏцӀун чӀчӏа, ххутӀбаялълъулӏ жиндир цӀцӏар реххссаралълъухъ Уцумихханасс дие кӀиго куй кьезе къотӀи гьабун буго, гьелълъул цояб дицца дуеги кьела, - ян. ХхутӀбаялълъулӏ мутагӀиласс цогидал машгьурал гӀадамазда гьоркьоб жиндирго цӀцӏар реххссаралълъухъ, Уцумихханассги гьессие кӀиго куй кьун буго, жиндир цӀцӏар мутагӀиласс кинаххун реххссарабали лъачӀого. ucumi{an co rosu` wujun wugo ucumi{an abulew {an. boCi-riqRi bujin guroni, heSul ?ibgo felmu bujun hezo. heSiye bi?ungo bopuleb Do bujun bugo fadamaR Dindiye reC-baq habi. Dindiye haburab reCa'u] poleb Doyalde hew wazunew wujun hezo. rosdal fadamal heSupa vaq na]e qalel rujun rugo. heSul rejeda untuleb Do habiRe 'idanigi joleb bujun hezo. heS aburab Doyalde inkar habiRe jolew xigi ?iwnigi wujun hezo. hedinab qadru-qimatalda wujingi fezogo, heSiye qwarifun bugo dibir-budunaS, dufa-al\am habulago, hedingo diniyal gara-zwariyal harulago, cogidal Var rafaral fadamaRda Gor` Dindirgi Var re{SeRe. helda;un heSul muradgi bujun bugo Diwgi, Dindir tu{um-pibilgi, umumul-fagar;igi farabaRul Var bugeb tu{umaldaSa razaralilan {alqalda rafiRabiRe. hedin;idal heS co qoyalda {uTba habiRe ruRmanalda wa]ine Kolew wujaraw mutafilaSda abun bugo Dindir Vargi co nu[aldafagi {uTbaya'u` re{Seyan. he'u], DinCa duye jigo kuy pelingi abun bugo. 'ij bugilan, mutafilgi raRi;un wugo. co ruRman qoyalda hew mutafil {uTba habiRe wa]un wugo. {uTba farab maValda habuleb bujun bugo. {uTba habulago, mutafilaS farab maVa' ucumi{anaSde{un hadin abun bugo - ya ucumi{an! hedinab judiyab hwe;un mun hawuraw alahaSe ?ibab reC bugo, hadal dur bercinal yasal mutafilRabaRe waq<u;un haruraw alahaSe ?ibab reC bugo! - yan. fodow wujun mutafilaSu] feneKun wujaraw dibir vaqgo wi{un `uhun wugo. - wa\, duCa bicuneb ?ib& - angi abun, hew janvun Tade wa]un wugo. maDgita'ur rujaral fadamalgi coca] ralahun, zwarpun {uTun rugo. hebme{a' mutafilaS farab maValda dibiraSda hadin abun bugo - mun wuVun Za, {uTbaya'u` Dindir Var re{Sara'u] ucumi{anaS diye jigo kuy peRe qoTi habun bugo, he'ul coyab diCa duyegi pela, - yan. {uTbaya'u` mutafilaS cogidal ma/hural fadamaRda horpob Dindirgo Var re{Sara'u], ucumi{anaSgi heSiye jigo kuy pun bugo, Dindir Var mutafilaS kina{un re{Sarabali ;azogo.
- Гъалбацӏги, бацӏги церги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ГЪАЛБАЦІГИ, БАЦІГИ, ЦЕРГИ ГъалбацӀилги, БацӀилги, Царалги гьудул-гьалмагълъи, божа-рокьи ккун букӀанила. Гьезул гьеб гьудул-гьалмагълъи гӀемер гъварилъун букӀинчӀила. Жеги лълъикӀго цоцазул хӀал лъалароанила. Цо-цо рохьор-къватӀир данделъараб меххалълъ, хъваш-баш гьабун, гара-чІвари гьабун, ратӀалъулаанила. Цоцахъ урхъун, гьадин рукӀинчӀого, цадахъ рукӏун лълъикӀ гуродай абураб масъала гьоркьобе рехханила ГъалбацӀицца. СихӀираб Цер дагьаб кӀкІвен-кӏкІвелеб букӀанила. Цидулгун квине лълъикӀаб гуреб гени, ГъалбацІалълъулгун квани, киндай букӀинаян букӀкІ-букӀкӀахъданила. Бацӏил цӀакъ гъира бахъун, ПачахӀассул рагӀи ритӀухъ гьабунила. Чара къосараб Цер тӀад рекъечӀого гӀечӀила, - квеш-лълъикӏ, киналго разилъун, къайицадахълъи гьабунила. Цо заманалда гьезухъе лълъикӀго чан щванила, дур-дир гьабичӀого, тӀибитӀун кваназе жоги букӀунаанила. Дагьаб чан къанагӀалъанила. Цинги гьезда гьоркьоб щвараб жо бикьулеб къагӀида бакканила. Гьаб къагӀидаялълъ нилӏ ракъун ххутӀизехъин ругин, жакъа кир речІчӀунги, цӀцӏикІкӀун жо балагьичӀого чара гьечӀилан, ПачахIасс гьезде амру гьабунила. Эххере рортанила, эххеде рортанила, гьезухъе гьеб къоялълъ цо хӀамаги, цо цІцІеги, цо бурутІги щванила. Чан бикьизе ирга Бацӏида букӀанила. Гьелълъ чан гьадин бикьанила: ПачахӀассе хӏама кьунила, жиндиего цӏцІе танила, Царае бурутӏ кьунила. Пачахӏ жиндасса цӀакъ рази батилеб гӀадин, БацІ ГъалбацІалде бадибе балагьанила, ПачахӀассулни гъолда цӀакъ ццим бахъун букӀанила. Цойидассан бараб квачӀалълъ БацӀил бер бахъун рехханила. Кколеб хӀалалълъ гьаб чан дуцца бикьеян, ГъалбацӀицца Царада амру гьабунила. Гьеб рекъезабизе дида цӀакъ лъалилан, Цер кӀанцӀун тӀаде бахъанила. Царацца чан гьадин бикьанила: радал мачӀикьаго хханассе бурутІ гьечӀого гӀоларила, къадеялдеги пачахlaсce хӀама гьечӀого рес гьечӀила, нилӏедасса кӀудиябги бугелълъул, къуватабги бугелълъул, къассиялдеги цІцІегӀаги гьечӀони бегьиларила... ЦӀакъ разилъун, ПачахӀасс гьикъанила: Унго гьедигӀан берцинго гьеб бикьизе дуда кин лъараб? - ан. Бихьун-бихьун гурищ жо лъалеб, гьагъале гьагъалълъ малълъана, - ян Царацца БацӀил бер бихьизабунила. Galbavgi, bavgi, cergi Galbavilgi, bavilgi, caralgi hudul-halmaG;i, boDa-ropi Kun bujanila. heRul heb hudul-halmaG;i femer Gwari;un bujinzila. Degi 'ijgo cocaRul \al ;alaroanila. co-co roFor-qwaTir dande;arab me{a', ]wa/-ba/ habun, gara-zwari habun, raTa;ulaanila. coca] ur]un, hadin rujinzogo, cada] rujun 'ij guroday aburab mas~ala horpobe re{anila GalbaviCa. si\irab cer dahab Jwen-Jweleb bujanila. cidulgun kwine 'ijab gureb geni, Galbava'ulgun kwani, kinday bujinayan buJ-buJa]danila. bavil vaq Gira ba]un, <axa\aSul rafi riTu] habunila. xara qosarab cer Tad reqezogo fezila, - kwe/-'ij, kinalgo raRi;un, qayicada];i habunila. co Ramanalda heRu]e 'ijgo xan ?wanila, dur-dir habizogo, TibiTun kwanaRe Dogi bujunaanila. dahab xan qanafa;anila. cingi heRda horpob ?warab Do bipuleb qafida baKanila. hab qafidaya' ni` raqun {uTiRe]in rugin, Daqa kir reZungi, ViJun Do balahizogo xara hezilan, <axa\aS heRde amru habunila. e{ere rortanila, e{ede rortanila, heRu]e heb qoya' co \amagi, co Vegi, co buruTgi ?wanila. xan bipiRe irga bavida bujanila. he' xan hadin bipanila. <axa\aSe \ama punila, Dindiyego Ve tanila, caraye buruT punila. <axa\ DindaSa vaq raRi batileb fadin, bav Galbavalde badibe balahanila, <axa\aSulni Golda vaq Cim ba]un bujanila. coyidaSan barab kwaza' bavil ber ba]un re{anila. Koleb \ala' hab xan duCa bipeyan, GalbaviCa carada amru habunila. heb reqeRabiRe dida vaq ;alilan, cer janvun Tade ba]anila. caraCa xan hadin bipanila. radal mazipago {anaSe buruT hezogo folarila, qadeyaldegi <axa\aSe \ama hezogo res hezila, ni`edaSa judiyabgi buge'ul, quwatabgi buge'ul, qaSiyaldegi Vefagi hezoni behilarila... vaq raRi;un, <axa\aS hiqanila ungo hedifan bercingo heb bipiRe duda kin ;arab& - an. biFun-biFun guri? Do ;aleb, haGale haGa' ma'ana, - yan caraCa bavil ber biFiRabunila.
- Церги бакьучги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Церги бакьучги Церги бакьучги рукIанила кIудиял гьалмагъзаби. Гьал цо сордоялълъ чанаре анила, гьазухъе щванила цо моххмоххги. Гьаз хIукму гьабунила гьаб бищун ракъараб заманалде нахъе тезе. Гьедин гьабги нахъе тун рукIаго, цо заманалдассан царацца абунила: – РачIа гьадаб моххмохх бищун цIакъаб макьу бихьаразе кьезе, – ян. Реганила кьижизе, бакьучалълъ бачIинахъего, кьижун биччан танила. Гьаб кьижарабго бахъун царацца моххмохх кванила. Бакъараб бакьучида гIемер меххалълъ кьижизе кIвечIила. Гьалълъ, тункун церги бахъине гьабун, абунила: – Гьа, бице дуда бихьараб макьу. Царацца абунила: – Цин дуцца бице. – Дида хханассул васассе чIчӏужу ячунеб бертин бихьана, гьениб гIемер кепалда гьекъолел, кваналел рукIана, кьолеб батIи-батIияб кунеб жоги букIана, – ян бицанила бакьучицца. Царацца абунила: – Гьеле гьедин берталълъ мун букIинги лъан, дицца мун кьижараб меххалълъ моххмохх кун букIана. Мискин бакьучалълъ гьелде данде абунила: – Бихъагихха дур чехь, дуцца макьил бицараб меххалълъго щаклъун букIараб дун, цощинаб хIила гьабизехъинцин батичIонийинхха гьаб болъоницца, – ян. Макьилӏ кванараб квеналдалъун бакьучалълъул чехь гIорцIцӏичIила, гьаб гъарин, бакъуцца хвезе дагьалълъ ххутIанила. Ххадубги бакьучицца царада абунила: – Гьалмагъзабазда гьоркьоб гуребги жидерго эбел-инссуда гьоркьобцин царацца хIила гьабулилан рагIун букIана, гьанже дир гьелда ракIчIчӏана. Жакъа къоялдасса нахъе тIокIаб дун дуда бихьизе гьечIо, дида мун бихьулареб гIадин, тIокIаб нилӏеда гьоркьоб гьудуллъиги гьечIо, дургун гьудуллъи гьабизегIан гьойдулгун гьудуллъи гьаби гIезегIан лълъикI. Гьанже цер гIодизе, ахIдезе лӏугьанила, мун гIадинаб лълъикIаб гьудулги батIалъун дида дунялалда букIине кIоларилан. Гьелдасса ххадуб гьалълъ гьедун рагIи кьунила жакъа къоялдасса нахъе жинцца бакьуч бакъун теларин, жибго бакъун букIанигийилан. Царае гьалълъулгун гьудуллъи тIезе бокьун букIинчIила, щайгурелълъул гьеб цадахъ гьечIого жиндиего гIураб квен батизе гьалда кIолеб букIинчIила. ГIабдал бакьучги гьалълъул рагIуда божанила, гьанжессаги гьалълъулгун гьудуллъиялда чIчӏанила. Гьелдасса ххадуб анлӏго-анкьго къоялълъ нахъасса къотIичIого квине жо балагьулелги рукIун, гьазда цо гьанал кесек батанила, кутакалда ссвакарал гьал цо нохъода кьижанила. Макьилӏ бакьуч цо рахIат хун лӏугьанила, гьаб, рагьун бергун, балагьанила, бугила царацца гьеб гьанал кесекги кун, гIорцIцӏичIеб меххалълъ босун бакьучил чахьалда каратIги бахъун, гьалълъул бакьал ххарцIунел. КIанцIун тIаде бахъанила бакьуч. – Дуцца гьабулеб жо щиб?! – ан ахIанила. – ГьанжелълъагIан дуцца гьабураб жо гьадингояб жо букIана, гьанже дие гьабураб жоялда данде ккун! Гьанже дицца мун кибе кIанцIаниги тезе гьечIо! Ццебе цер тIуранила, ххадуб бакьуч бортанила, гьедин унел гьал цо кьурул рагIалде щванила. Царацца рачӏчI ццебеххун хьвагIанила, рачIчӏалда ххадуб хапулаго бакьуч кьурулӏа гъоркье реххун анила, гIодобги речIчIун, бетIер бихъанила. TIacсa гьоркьеги балагьун, царацца абунила: – Гьанже балагьилин, – абун. Гьадинги абун, цер ахIулаго кечIгун, анила.
- Кетуги гӏункӏкӏги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
КЕТУГИ ГІУНКІКІГИ Бакъараб ГӀункӀкІ букӀанила, цо мискинчияссул нахъарокъоб щиб-щибниги жоялда жанибе баккарун, квине жо балагьулеб. Гьениб букӀараб цо гибиялълъул кӀалтӀеги бахун, махІ ссунтӀулеб букӀараб гьеб анила гибиялълъубе бортун. Гьениб букӀун буго рукъалълъул бетӏергьанасс васассе чӀчӏужу ячине хӀадур гьабураб гӀим. ГӀемераб гӀакъуба бихьанила ГӀонкІкӀода гьеб гибиялълъусса къватӀибе борчӀизе кӀоларого. Кинниги, гъанкъизеги бахъун, цӀцӏалтун биччизеги биччун, хӀалалълъ къватӀибе борчӀанила гьеб гибиялълъусса. Гибиялълъул рагӀалдаги чӀчӏун, гӀималълъ биччизабураб жиндирго рас чӀчӏикӀун, гьеб бакъвазабизе лӏугьанила ГӀункІкІ. Цо заманалдассан, рас бакъвалелде, гьелълъул бетӏер ссверанила. Бахун цо бакІалдегун, цин кечӀ ахӀанила ГӀонкӀкӀоцца. Цинги жибго жиндаго гаргадизе лӏугьанила, Катикьа хӀинкъизе ккани, гьебго кигӀан цӀакъабин бугеб, цо дихъе биччайин гьеб, дицца бихьилин гьелълъие гьабулеб жоян букӀанила гьеб ахӀи-хӀуралда. Бигьа гьабун нахъассаххунги бачӀун, хапун ккунила Катицца ГӀункІкІ. Цо-кӀиго нухалълъ цӀцӏирцӀцӏири бахъанила ГӀонкІкӀол, тӀокӀаб гьаракь гьабилалде, Катицца кун лӏугӀизабунила ГӀункІкІ. ketugi funJgi baqarab funJ bujanila co miskinxiyaSul na]aroqob ?ib-?ibnigi Doyalda Danibe baKarun kwine Do balahuleb. henib bujarab co gibiya'ul jalTegi ba[un, ma\ SunTuleb bujarab heb anila gibiya'ube bortun. henib bujun bugo ruqa'ul beTerhanaS wasaSe ZuDu yaxine \adur haburab fim. femerab faquba biFanila fonJoda heb gibiya'uSa qwaTibe borziRe jolarogo. kinnigi, GanqiRegi ba]un, Valtun biXiRegi biXun, \ala' qwaTibe borzanila heb gibiya'uSa. gibiya'ul rafaldagi Zun, fima' biXiRaburab Dindirgo ras Zijun, heb baqwaRabiRe `uhanila funJ. co RamanaldaSan, ras baqwalelde, he'ul beTer Sweranila. ba[un co bajaldegun, cin kez a\anila fonJoCa. cingi Dibgo Dindago gargadiRe `uhanila, katipa \inqiRe Kani, hebgo kifan vaqabin bugeb, co di]e biXayin heb, diCa biFilin he'iye habuleb Doyan bujanila heb a\i-\uralda. biha habun na]aSa{ungi bazun, [a<un Kunila katiCa funJ. co-jigo nu[a' VirViri ba]anila fonJol, Tojab harap habilalde, katiCa kun `ufiRabunila funJ.
- Хӏамаги бацӏги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Хӏамаги бацӏги Ххасало гьирал раччун, гьодги ччукӏун, хьалбаздасса расги хӏулун, цо хераб Хӏама ихдал гӏурччин ххарда кваналеб букӏанила. Хуриб ххер кун, лъарахъ лълъим гьекъон, бакъ бухӏидал, рохьобе лӏугьун, гьогьомидал, сагаялда кванан, бокьараб хӏалалда букӏанила. Гьанже дидасса лълъикӏаб хӏалалда дунялалда щибго гьечӏилан, ракӏалдаги букӏанила гьелда. Цо къоялълъ Хӏама лълъим гьекъезе лъарахъе бачӏанила. Маргъал гӏадаб чабххидассан, таххта гӏадин кӏургӏун чваххулеб лълъадал каркариялълъулги, сасараб гьороцца гьулчулеб ралъад гӏадин, цояб рахъалде чваххун унеб рохьил ващиялълъулги гьайбатаб бакъан букӏанила. Лълъим гьекъолеб Хӏамида тӏадеххуниссан цо чвархъи рагӏанила, эххеде борхханила. Тӏасса гъоркье цо Бацӏ бачӏунеб бихьанила. Хӏамил нусабго лага букӏкӏанила, ругелниги расал рахъун чӏчӏанила. Берал чӏваркьанила, гьекъолеб букӏараб лълъим кӏалдиб кковухъе ххутӏанила, тӏуртӏудулаго, Бацӏихъ балагьанила. Бацӏицца мун гьаб бакӏалда щиб гьабулебан, гӏассияб гьаракь гьабунила. Дун гьаниб къойилго букӏуна, бетӏергьанасс ниж кидаго гьанире гъола, - ян Хӏама хӏелхӏедизе лӏугьанила. Кидагояли гьаниб ццерекъад дицца чӏвараб хӏамаги букӏун буго, ццебего лъарабани дида гьанир хӏамул рукӏунеллъи, - абун Бацӏ тӏаде-тӏаде къанила. Рухӏ мукъулукъиде бахъараблъи бичӏчӏун, хераб Хӏамицца Бацӏие батӏияб наку бачанила. Гуккун, батӏа гьабун гурони, жиндир богӏолабазукьа Бацӏ хӏинкъулареблъи лъарабго, гьелълъ гьадинал жал рицанила: Гьай пакъир, Бацӏ, цӏакъ бакъун батила мун. Чохӏоцца хвараб, баккизе би гуреб, чӏурхӏараб къехь гӏадаб дир гьодал хъарссунилан, мун гӏорцӏцӏиларо. Хераб гвадаралдасса дуе гьан гьуинал, рахь рекӏарал кӏуртул лълъикӏ. Дир рокъор ругел кӏуртул кванай. Гьел ункъго руго дир. Гьезул цоялда цӏцӏар Гӏебсса, цогиялда цӏцӏар Ххаласса, лъабабилеб Лъараб, ункъабилеб цӏцӏар Лъачӏеб буго. Дун чӏчӏолеб бакӏ гӏемер рикӏкӏад гьечӏо. Гьадале, гьадаб бакӏалда буго. Къасси бачӏа, къан ккун дуего бокьараб кьела, - ян гаргаданила Хӏама. Бацӏида ракӏалде кканила: абухъего, рахь рекӏараб кӏертги щолаго, дие цӏцӏацӏцӏазе аб хераб болъонго щай къваригӏараб абун. Лълъикӏаб жоялде ургъанин мунилан абун, Хӏамие баркалаги кьун, Бацӏ цо рахъалдеххун балагьун анила. Хӏама квана-гьекъон, параххат букӏанила. Бацӏги, кидадай къасси мехх щвела, сордо бачӏинаян, кӏартиде бугеб ххиялалълъ хьуликъвачӏа бихъулеб хӏалалда букӏанила. Роол къо анила, бакъанил гӏуж щванила. Хӏама, рокъобеги билълъун, щула гьабун, рахан нуцӏцӏагун, парахханила. Къасси, чи кьижараб, гӏадамассул чӏинхъи гьечӏеб гӏужалълъ, Хӏамил кӏалтӏеги бачӏун, цо жо тенкезе лӏугьанила. Хӏамида лъанила Бацӏ бачӏун бугеблъи. Лъаниги, кӏалъачӏого чӏчӏанила. Аб жегиги рокъобего бачӏинчӏого бугоян, Бацӏицца “Гӏебсса!” абун ахӏанила. Хӏамицца, гӏебсса хӏосс бан бугилан абунила. Бацӏицца “Ххаласса!” абун ахӏанила. Хӏамицца, ххаласса къоно тӏамун бугилан абунила. Бацӏицца “Лъараб!” абун ахӏанила. Хӏамицца, лъарабани, лъарахъго чӏвалаанилан абунила. Бацӏицца “Лъачӏеб” абун ахӏанила. Хӏамиццаги, лъачӏелълъул гурищхха, рокъобеги борчӏун, Хӏама параххат бугебилан жаваб кьунила. Бацӏ, гьабилеб жоги тӏагӏун, цӏакъ-цӏакъ тенкезе, нуцӏцӏа гъуризе лӏугьанила. Хӏама гьагӏданила, чӏичӏиданила, рахъун бетӏергьабаз Бацӏ гьородухъ босизабун анила. {asalo hiral raXun, hodgi Xujun, FalbaRdaSa rasgi \ulun, co [erab \ama i[dal furXin {arda kwanaleb bujanila. [urib {er kun, ;ara] 'im heqon, baq bu\idal, roFobe `uhun, hohomidal, sagayalda kwanan, boparab \alalda bujanila. hanDe didaSa 'ijab \alalda dunyalalda ?ibgo hezilan, rajaldagi bujanila helda. co koya' \ama 'im heqeRe ;ara]e bazanila. marGal fadab xab{idaSan, ta{ta fadin jurfun xwa{uleb 'adal karkariya'ulgi, sasarab horoCa hulxuleb ra'ad fadin, coyab ra]alde xwa{un uneb roFil wa?iya'ulgi haybatab baqan bujanila. 'im heqoleb \amida Tade{uniSan co xwar]i rafanila, e{ede bor{anila. TaSa Gorpe co bav bazuneb biFanila. \amil nusabgo laga buJanila, rugelnigi rasal ra]un Zanila. beral zwarpanila, heqoleb bujarab 'im jaldib Kowu]e {uTanila, TurTudulago, bavi] balahanila. baviCa mun hab bajalda ?ib habuleban, faSiyab harap habunila. - dun hanib qoyilgo bujuna, beTerhanaS niD kidago hanire Gola, - yan \ama \el\ediRe `uhanila. - kidagoyali hanib Cereqad diCa zwarab \amagi bujun bugo, Cebego ;arabani dida hanir \amul rujunel;i, - abun bav Tade-Tade qanila. ru\ muquluqide ba]arab;i biZun, [erab \amiCa baviye baTiyab naku baxanila. guKun, baTa habun guroni, Dindir bofolabaRupa bav \inqulareb;i ;arabgo, he' hadinal Dal ricanila - - hay <aqir, bav, vaq baqun batila mun. xo\oCa [warab, baKiRe bi gureb, zur\arab qeF fadab dir hodal ]arSunilan, mun forVilaro. [erab gwadaraldaSa duye han huinal, raF rejaral jurtul 'ij. dir roqor rugel jurtul kwanay. hel unqgo rugo dir. heRul coyalda Var febSa, cogiyalda Var {alaSa, ;ab~abileb ;arab, unq~abileb Var ;azeb bugo. dun Zoleb baj femer riJad hezo. hadale, hadab bajalda bugo. KaSi baza, qan Kun duyego boparab pela, - yan gargadanila \ama. bavida rajalde Kanila, abu]ego, raF rejarab jertgi ?olago, diye VaVaRe ab [erab bo;ongo ?ay qwarifarab abun. 'ijab Doyalde urGanin munilan abun, \amiye barkalagi pun, bav co ra]alde{un balahun anila. \ama kwana-heqon, <ara{at bujanila. bavgi, kidaday qaSi me{ ?wela, sordo bazinayan, jartide bugeb {iyala' Fuliqwaza bi]uleb \alalda bujanila. rool qo anila, baqanil fuD ?wanila. \ama, roqobegi bi'un, ?ula habun, ra[an nuVagun, <ara{anila. qaSi, xi piDarab, fadamaSul zin]i hezeb fuDa', \amil jalTegi bazun, co Do tenkeRe `uhanila. \amida ;anila bav bazun bugeb;i. ;anigi, ja;azogo Zanila. ab Degigi roqobego bazinzogo bugoyan, baviCa “febSa!” abun a\anila. \amiCa, febSa \oS ban bugilan abunila. baviCa “{alaSa!” abun a\anila. \amiCa, {alaSa qono Tamun bugilan abunila. baviCa “;arab!” abun a\anila. \amiCa, ;arabani, ;ara]go zwalaanilan abunila. baviCa “;azeb” abun a\anila. \amiCagi, ;aze'ul guri?{a, roqobegi borzun, \ama <ara{at bugebilan Dawab punila. bav, habileb Dogi Tafun, vaq-vaq tenkeRe, nuVa GuriRe `uhanila. \ama hafdanila, zizidanila, ra]un beTerhabaR bav horodu] bosiRabun anila.
- Чӏухӏухъан | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ЧӏУХІУХЪАН Цо цӀакъ чӀухӀарав чи вукӀанила. Къойил, нахудасса рацІцІунаго михъалгун, вачӀунаанила гьев годекӀаниве. Валлагь, жакъаги ххинкӀалги ххинк гӀанассеб моххмоххги кванаян, веццарулаанила гьев. Цо къоялълъ, гьединго михъалги рацІцІунаго, вачӀун годекӀаниве щварав гьессда рагъида гӀодулей яс йихьанила. - Мун щай гӀодулей, - ан цӀехханила инссуцца. - Дада, дуцца михъазда бахунеб букӀараб моххмохх катицца ана!- ян ахІданила яс. ЧӀухӀухъанассул михъал далун анила, асскӀор рукIаралги гӀагӀаялда релъанхъанила. zu\u]an co vaq zu\araw xi wujanila. qoyil, na[udaSa raVunago mi]algun, wazunaanila hew godejaniwe. walah, Daqagi {injalgi {ink fanaSeb mo{mo{gi kwanayan, weCarulaanila hew. co qoya', hedingo mi]algi raVunago, wazun godejaniwe ?waraw heSda raGida foduley yas jiFanila. - mun ?ay foduley, - an ve{anila inSuCa. - dada, duCa mi]aRda ba[uneb bujarab mo{mo{ katiCa ana!- yan a\danila yas. zu\u]anaSul mi]al dalun anila, aSjor rujaralgi fafayalda re;an]anila.
- Хӏожоги Гуржиявги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
УНССОКОЛОССА ХIОЖОГИ ГУРЖИЯВГИ (Ххалкъияб ххабар) НекIо заманаялълъ магIарулал давладе хьвадулел рукIун руго. ГIемериссел гьел Гуржиялълъе унел рукIун руго. Цо нухалълъ Унссоколосса ХIожо абурав чи ун вуго гьениве давла гъабизе. Щибниги жоги щвечIого, гьасс гуржиязул цо гьитIинав васс викъун, жиндаго цадахъ Унссоколове вачун вуго. Жиндирго лъималги рукIинчIого гьасс гьав жиндиего васлъун тун вуго. Вас кIудияв гIун, гIолохъанчи лIугьун вуго. Гьав кIудияв гIунагIан гьессул жиндирго ватIаналдеххун ххиялал гIемер кколел рукIун руго. ГьитIинаб меххалълъ живго вукIарав рукIа-рахъин, эбел-эмен, росу-ракь: ццебесса унеб букIун гьечIо гьассда даим. КигIан цIакъ вокьун ХIожоцца хьихьулев вукIаниги, ракI Гуржиялдеххун цIцIалеб букIун буго. ХIожо щаклъун вуго гьассда. Къойидасса къойиде вас пашманлъулев вихьараб меххалълъ, ХIожоцца цо нухалълъ ахIун, гьикъун буго гьассда: – Я, дир вас, мун дида гьаб заманаялълъ пашманго вихьулев вуго, щиб дуда ракIалда бугеб жо, дуе бокьараб жо щиб? Дуе бокьараб жо гьабизе буго дицца, бице дурго, – ян. – Дуцца, дир эмен, дун гIезегIан берцингоги хьихьулев вуго, дие щибниги гьаниб камураб жоги гьечIо, кигIан кин бугониги дун ватIаналълъ цIцIалев вуго, ватIаналълъ дие рахIат толеб гьечIо. Дур ракI унтилебан дудаги абизе кIоларого, дир ракI унтун, дидаги хIехьезе кIоларого вукIана дун. Гьанже дуцца цIеххедал бицинчIого тезе бегьичIо. Виччай дуцца дун инссул росулIе, – ян бицанила васасс. ХIожоцца цIакъ пикру гьабунила васасс бицараб жоялълъул, цIакъ кIудияб ургъел кканила гьассда. Гьадинаб пикруялълъ букIанила гьассул ургьимесс бухIулеб: – Диего гьавурав васгIан дие гьав вокьулев, гьассие бокьараб жо гьабичIони, ракIалълъ толарев, гьадигIан ине бокьарав кин гьав чIчIезавилев, гьассдасса ватIалъун кин дун вукIинев? Аххир хIукму гьабунила ХIожоцца: «Васассе бокьараб жо дицца нахъчIваларо. Таваккал! Гуржиялълъ дир вас вугингIаги вукIина ракI парахатлъиялълъе». ХIожоцца чу-ярагъ, ретIел-тIеххги къачIан, вас нухда лъунила. Вас ун дагъабго заманалдассан ХIожое вас гьавунила, жеги дагьабго заманалдассан живго ХIожоги хванила. Гьессул хIурмат гьабун, васассда ХIожо абураб цIцIар лъунила. ХIассил, васассда ХIожол ХIожоян абулеб букIун буго. МоцIцIал анила, сонал анила, ХIожол ХIожо гIун вачIунев вукIанила. Гуржиялълъе чабхъаде хьвадун-руссун, хьвадун-руссун росдал багьардурзабиги рукIанила. Рокъоб букIа, къватIиб годекIаниб букIа, жибго чабхъадул бицун, давладул бицун рукIунел рукIанила гIадамал. БахIарчилъи гьабурассул цIцIар гьабулеб букIун буго, къадарлъи бихьарав ссуризавулев вукIун вуго. Росу рагIалде майданалде рахъун чуязда гьунарал гьаризе ругьунлъулел, гIужда туманкI речIчIизе, ххвалчен хьвагIизе ругьунлъулел рукIун руго. ХIожол ХIожоццаги хIаракат гьабулеб букIун буго ххеххгого жиндасса кIудияз гьабулеб батараб гьабизе ругьунлъизе. Рокъоб эбелалълъги бицунеб букIун буго гьассда эмен давладе хьвадулев вукIараб куцалълъул, Гуржиялълъ вас вукIиналълъул. ХIассил, гьассул ракI чабхъаде иналълъул пикруялда букIун буго. Цо нухалълъ къачIадун руго росдал гIолохъаби чабхъаде ине. ХIожол ХIожоцца абунила гьезда: – Бегьиларищ нужеда цадахъ дунги вачIине? – ян абун. – Угь, гьасс бицунеб жоялълъухъ балагье, мун гIадинал гIиссинал чагIи гьенире кин унел? Щиб дуцца гьениб гьабун бажарилеб жого? Рокъов чIчIа, гьудул, кIваричIин дуе чабхъенго. – Бугониги дун нужеда цадахъ вачIине къачIала, – янги абун, гьасс рокъовеги вилълъун хIадурлъи гьабун буго. Эбелги гьедигIан данде чIчIун. гьечIо гьассда, щайин абуни, доб заманаялълъ гьеб цIакъ билълъараб жо букIун буго. – Гьав ХIожол ХIожо нилIеда цадахъ вилълъани, нилIее нухда гьассул квалквал гуреб тIокIаб жо ккеларо, рачIа гьав вагъа-вашаризегIан нилI ххеххго рахъун, гьаб ракь тезин, – абураб хIукму гьабунила гIолохъабаз. Ихдалил къоялъ хъахIлъи балелдего анссадерил гIолохъабазул гьитIинабго къокъаялълъ росу танила. Радал вахъаравго ХIожол ХIожо къачIан чу-ярагъгун, эбелалълъе къо-мехх лълъикI гьабун, рекIун, кьабун чода цIцIалгун къватIиве вахъанила. Балагьанила, ун ругила гьалмагъзаби гьавги тун. Гьаб жо квеш рекIедаги унтун, ццимги бахъун, кьабизабунила гьасс гьазда ххадуб. Бер рукIкIиналде гIазул мугIрузул ракьанда къайиги чIван, сордо базе рещтIараб анссадерил къукъаялде тIаде кканила гьав. – Ассалам гIалайкум гIолохъаби! – ВагIалайкум салам, рещтIа! – РещтIинаро, нужеда цадахъ рещтIине бокьун букIарабани, нуж дунги тун инароан. ХIожол ХIожоцца ХIожол цIцIар гIодоб толареблъи лъай нужеда, – абураб рагIиги реххун, ХIожо довегIанги ун, хIатIихьен бан чуги биччан, живго цохIо къайиги чIван чIчIун вуго. Радал бахъун, къокъа ун буго цояб рахъалдеххун балагьун, ХIожол ХIожо ун вуго цояб рахъалдеххун балагьун. Гуржиязул мугIрузда терелевги вукIун, аххир цо бакIалда ХIожол ХIожода цо гIулбузул илхъи бихьун буго. РачIа дицца гьаб илхъи хъамун бажаруларищали бихьизин абураб жо ракIалде ккун буго гьассда. Лъабго-ункъо илхъичиги ватун, кьвагьи-гIанхъиги ккун, ХIожол ХIожо лIукъ-лIукъун гIодов ккун вуго. РачIун руго гуржиял тIаде, цIеххон буго – мун щив, кисса – ян абун. Щиб гьабуниги бицун гьечIо гьасс. Гьаб гъалмагъалалде тIаде цоги гIиял къаяздасса гIадамалги рачIун руго. Ссверун лIугьун балагьанила гьал, пайда щиб – лIукъ-лIукъун хвеялде ван вугониги, къорицца ккураб бацI гIадин ццидаххарав ярагьунев гьитIинав гIолохъанчи вугила. Цояз абунила бацIицца бацIил гIамал теларин, рачIайин гьав чIван реххизин абун, цояз абунила гIайиб гурищ гьитIинав гIолохъанчи, гьаб сапар гьадин ккун тун нахъа тIокIав вачIинарин гьав, рачIа гурхIел гьабизин абун. Аххир цоясс абунила гьав чи диццаго хьихьизе тIадеги восила, рокъовеги вачина абун. Гьассде гIемер данде чIчIолев чиго вахъинчIого гуржиясс ХIожол ХIожо гьакидаги лъун жиндирго рокъове щвезавунила. Гуржиясс лълъикIал даручагIи ахIун, ХIожол ХIожое дараби гьаризе тIамунила, лълъикIаб квен кьун, хьихьанила, цIакъ гьассул ургъел гьабунила. Цо моцIцIгIанаб мехх бараб меххалълъ ццеве вукIарав гIадав чи лIугьанила гьассул. ЛIугьараб щинаб жоялълъул пикру-хIисаб гьабураб меххалълъ ХIожол ХIожода гьадинаб жо ракIалде кканила: – ГьадигIан дие хъулухъги гьабун, захIматги бихьун дун щайдай гьав чияссе? Мун щив абун тIоццебе цIеххараб меххалълъ диццаги бицинчIо, тIокIаб гьассги цIеххечIо, рачIа дицца гьалълъул цо кIалъай гьабизин гьассдеххун, кин бугониги дир рухI хвассар гьабурав чи вуго гьав, гьаб жо дида кIочон тезе бегьиларо. Цо къоялълъ ХIожол ХIожоцца гуржияссе жиндир ракI чучанила: – Дун вуго Унссоколосса ХIожол ХIожо, дуцца дун холев бакIалдасса вахъинавуна, дуе гьабизе лълъикIлъи лъаларого вуго дун, дуцца дун цIакъ нечезавуна, ххассго гьаб лIукъел ккеялълъе сабабги дун рокъове вачун хьихьизе гIадаб букIинчIелълъул. ХIисаб щиб дуцца дие гьаб лълъикIлъи гьабиялълъе, гьалълъул цо магIна батила? Гуржияв, гьасс гьаб ххабар бицараб меххалълъ, цо тамашаго вохханила. Тирщун тIадеги вахъун, бан къвалгун къочанила ХIожол ХIожода, роххалил магIу бачIанила чваххун; гьанже бицанила гуржиясс гьаб ххабар: – Дур инссуцца дун, гьитIинав чи, гьанже мун гIадин вачIинеги вачIун гьанивегун гьанисса хъамун ун вукIана Унссоколове. Гьенив гьесс дун жиндирго васлъун хьихьана цо чанго соналълъ, цинги, гIолохъанчиги гIезавун рокъове виччантана дир гьариялда рекъон. Дун дова вугеб меххалълъ дир ракI гьанибе, гуржиялълъе цIцIалаан, гьаниве щун тун ххадуб дир ракI кидаго Унссоколиб букIунаан. ЛIукъун магIарда мун ватараб меххалълъ танкан абун Анссадерил росу, гIолохъаби, живго ХIожо, гьессул хъизан ццебе бачIун чIчIана дида, дирго вацц вихьаравгIанги воххун вукIана дун мун вихьараб меххалълъ. Бихьулищ дуда, вукIинеги дир вацц вукIун вуго мун. НилIер гьаб гьоркьоблъи, кватIун бугониги, тIатун лълъикI ккана. ХIожол ХIожоцца гьелдасса нахъеги бана гьаниб цо моцIцIганассеб мехх. Ине бокьараб меххалълъ гуржиясс гьассие лълъикIаб чу-ярагъгун ретIел-тIеххги къачIанила; ххуржинир эбелалълъе сайигъаталги лъун, цIакъ лълъикIаб хIалалда нухда тIамунила. ХIожол ХIожо рокъове щун цо-кIиго лъагIел бараб меххалълъ эбелалде ракIалде кканила гьассие чIчIужу ячине. Гьеб пикру васассда бицараб меххалълъ гьавги разилъун къачIадизе лIугьанила. РосолIа жидеда рекъарай гIаданги ятун, гьассие гьейги гьелълъие гьавги вокьун, къотIи-къайги тIубан, бертаде къачIаданила. ХIожол ХIожоцца хъван кагъат битIун буго Гуржиялде жиндирго гьобол берталълъе ахIун. Бертаде кIиго къо ххутIараб меххалълъ кIиго-лъабго гьалмагъзабигун цадахъ, гIемераб сайигъатгун щванила гуржияв. Росолълъе лIугьун вачIунев меххалълъ лълъадаре унел ясазул къокъа данде кканила гьассда. Гьезда гьоркьой йикIарай цо хъахIаб гормендуги къарай, чIчIегIераб кьенссер-бералълъул гIадамалълъул берцинлъиялълъухъ балагьун виххун ххутIанила гьав. ХIожол ХIожохъе щвараб сагIаталълъ гьасс жинда йихьарай гIадамалълъул бицанила. ХIожол ХIожоцца абунила гьассда: – Дидасса кIудиявги вуго мун, амма дуцца жеги чIчIужу ячун гьечIо. Дир хIисабалда тIоццебе дур бертин тIубазабизе ккола нилIецца. РачIа нилIецца гьадай дуда йихьарай гIадан дуе ячинин, цинги дир бертадул тIалабги гьабила нилIецца. Гуржиясс абунила: – Дуцца бицунеб битIараб буго, амма нижехъ чIчIужу гьедигIан ххехх ячунаро. Лъеберго, лъебералда щуго сон бараб меххалълъ рачуна нижехъ лълъудби. Гьанже дун ригьалде щунги вуго, дун дур гIакълуялда рекъола. КIиябго бертин тIубазабила нилIецца. Гьанже ХIожол ХIожоцца жиндирго бертин гъоболассе ссверизабунила. Гуржияссе йокьарай ясги жиндирго абурай гIадан ятун, гьасс инеги ун гьелълъул эбел-инссуда ва гьелда жиндаго ккараб жо ва жинцца ваццассул бакIалда вугев гьоболассул адаб-хIурмат цIунун гьабураб хIукмуялълъул бицанила. Яс ссихI къотIун чIчIанила. Эбел-инссуцца абунила: – Ясалълъул иххтияр нижецца духъе кьуни бугин, дуего бокьараб гьабе, – ян. Нахъеяб къоялълъ гуржияссул гъалмагъзабазда цо Унссоколосса чиясс бицун лъан буго гуржияссе ячинехъиней йигей гIадан ХIожол абурай яс йикIин. Гьез бицун, гуржиясс цIакъ гIажаиблъи гьабун, жиндир ккараб гъалатIалълъулги ХIожоцца жиндие гьабизехъинеб букIараб намусалълъулги пикру гьабун тамашалъун ххутIанила. Вилълъун ХIожода кIудияб гIайибги гьабун, хъващтIан бертин ХIожоде буссинабиялълъул тIалаб гьабунила гьасс. Анкь Унссоколобги бан, ссухIмат-кепги тIубазабун, гьудул-гьалмагъзабазе сайигъаталълъе анссадерил тIилал, хъалиябиги росун нахъ вуссанила гьав. Рокъове щун дагьаб мехх балелде гьасс чIчIужуги ячанила, ххеххгого гьазие васги гьавунила. Жиндир заман щвараб меххалълъ гьев васги цIцIализе витIун паракъат вукIанила гьав. ЛълъикIалан сонал анила, цо заманаялълъ ХIожоде ракIги щун, гьасс хъванила кагъат, дагьаб мехх базе, хъизанги бачун, мун нижехъе вачIа абун. Живго ине ссанагIат бугеб заман букIинчIила гьассул. ХIожо хъизанги бачун вачIанила гьассухъе. ХIожол гьеб меххалълъ кIиго лъагIарав гIадав вас вукIанила, гьевги кIудияй эбелалълъухь тун ун руго гьал гуржиялълъе. Анкь бараб гIадинаб меххалълъ гуржияв цадахъ чIчIужуги ячун цо къваригIилалълъе ине ккун, ХIожода абунила гьасс, дун цо лъабго къоялдассан вуссинин, дуцца гьаб рукъ-къаялълъулги тIалаб гьабе, квешав чи ва цIцIогьорассдасса цIцIодорлъиги гьабеян абун. Доб заман букIун буго цIакъ квешаб заман. Щивасс жинди-жиндир бакI, хъала цIунулеб гIадин, цIунизе кколеб букIун буго. Багьадурлъи-бахIарчилъийин абун талавурчилъи-цIцIогьги цIакъ тIибитIун букIун буго. Цояз бикъулеб-хъамулеб, цояз чIвалел, цоял цIцIогьабазда ххадур, гьедин бада-гъудуралълъул заман букIун буго. Кодоб ярагъ гьечIого чи сапаралдеяли щай гурин, магъилълъе, хIатта рокъосса къватIивецин лIугьунареб заман букIун буго. Гуржияв ун нахъияб сордоялълъ цIцIализе ун вукIарав гьассул вас моцIцI базе рукъове виччарав чи Тулписалдеги щун, каву буххун буго. ХIожода гьаб рагIун гьечIо. ГIемераб меххалълъ буххун рагIичIеб меххалълъ гьав вас живго ругьунаб бакIалдасса тIадеги вахун, кавуда тIассан дваман рагьде кIанцIун вачIун вуго. Гьеб меххалълъ ворчIарав чи, ХIожо босун туманкIгун кIанцIарав къватIиве, гьабураб гьаракь: гьав диде ахIдолев чияр чиго щиван абун ракIалде ккарав вас ссихI къотIун чIчIун вуго. Гьедин гъов чIчIараб меххалълъ ХIожоцца, гьав чи лълъикIав чи гурилан абураб жоги ракIалде ккун, речIчIун туманкIгун чIван реххун вуго гуржияссул вас. Жинцца чIварав чи щивалицин лъачIого, ХIожоцца вехъерхъун гьав гъоркьарокъове реххун тун вуго. Ургъел ккун гIадинги вукIанила гьав цин, бугониги, нахъа ракIги гIодобе биччан, гьедегIан пикруго гъабичIого гIадин ххутIанила гьаб иш гуржияв вуссинегIан. Цо заманаялълъ рачIанила гуржиявги чIчIужуги. – Гьа, кканищ щибниги жо дун гьечIого? – ян гьикъанила гьасс. – Валлагь, къассде цIцIогьоде вачIун вукIарав цо чи вугинхха гьагъава дицца чIван, лъаларо щивали, мунго балагьехха, – ян абунила ХIожоцца. Вилълъун балагьанила гуржияв, вугила жиндирго цохIо вукIарав вас чIван лъун бухIун чехьги бахъун, хIанчIун жиндирго кIветIгун, вилълъанила гьав жиндирго чIчIужуялълъухъе. Бицанила гьалда лIугьараб жо. ГIодизе-чIвадизе лIугьуней йикIанила гьай, россасс абунила: – Гьанже гьелълъул пайда гьечIин, гьаб иш нилIецца къватIибе бахъичIого бахчизе ккола, ххассго гьоболассда лъазе биччазе бегьиларо. НилIецца вас ахикь вукъила кколеб хIалалда, – ян абун. Гьаз васги вукъанила щибниги ХIожода ва гьессул чIчIужуялда хIал лъазе биччачIого. Цодагьал къоял ран ххадуб гьалги Унссоколоре руссанила. Гьал ун ххадуб, кколеб ххадуб жоги гьабунила гуржиясс васассе. ХIожо рокъове щун моцIцI балелде ххадуб гуржияссул кагъат бачIанила: – Дуда чIварав чи, – ян хъвалеб букIанила гьасс, – дир вас вукIана. Дир чехь бухIараб гIечIого, дургийищ гьанже бухIизабилебан дицца дуда лъазабичIого тана. КигIан кин бугониги, бидухъ би абураб нужерго кициялда рекъон, дир васассул би гIодоб тезе бокьун гьечIо дие. Дуцца дихъе дурго вас витIе чIвазе, нилIер гьудуллъи тIечIого гIаданлъиялда билълъинабизе ракIалда батани. Цин ХIожол жинцца чIварассда ракI гурхIанила, цинги жиндир вас чIвазе витIиялълъул ургъел кканила гьассда. Бералда бихьулаго чIвазе вас кин витIилев? ВитIичIого тани магIарул яхI-намус, гьелдасса цIакъаб бидухъ би бецIизе кколеб гIадат. Цояб рахъалдассан чIчIужу йигила юхарилей-чIвадилей. ГIемер ургъараб меххалълъ гьазул хIукму кканила вас витIизе. МагIирукъ лъун букIанила гьассул рокъоб вас инегIанго. Къо-мехх лълъикIги гьабун, витIун анила вас. Цо анцIго къоялдассан витIарав чиги вуссанила бидул цIураб васассул ретIелги босун. Цо дагьаб заман ун ххадуб ХIожол ХIожое цоги вас гьавунила. Гьалълъул ххабар гьасс Гуржиялълъе гьоболассухъеги битIанила. Гьасс хъванила гуржияссде: – Дидасса ххатIа ккун дур васги хванин, дуцца гьессул рецIелги бахъанин. Гьанже нилI цоцазда тIассаги лIугьун, ракIазулI хъублъиялълъул рагIадгIаги ккун батани, гьебги нахъе бацIцIад гьабун цIияб гьудуллъи гьабизин. Дуцца чIварав васассул бакIалда дие васги гьавунин абун. Гуржиясс жиндихъе кагъат босун вачIарав чияссухъе кьун гьассие гьадинаб жаваб бачIанила. – Гъоб дуцца бицунеб хъублъиялълъул рагIадали щай гурии, дир рекIелI гьелълъул махIцин гьечIо. Амма нужерго гIадат билълъинабизе ккола тIубараб куцалда, – ян хъвалеб букIанила гьасс, – дуцца чIварав дир вас вукIана цIцIалун лIугIизе гIагарарав гIолохъанчи; дуцца дихъе чIвазе битIун бачIана лъимер. Кин кколеб дуда, нилI рарщалъун ругищ? Дир хIисабалда гьечIо. Рарщалъизе ккани, дуцца дихъе чIвазе гьев цояв васги витIизе ккола. Гьеб меххалълъ тIуба-гъубала нилIер гьоркьоблъи. Гьанже цIакъго ургъел кканила ХIожодаги чIчIужуялдаги. ХIожоцца гIемер пикру гьабунила гуржиясс бачIараб кагътил. ХIисаб гьабураб меххалълъ гуржияссул пикру битIун бихьанила гьассда. Гуржияссул бакIалда дунго вукIаравани, диццаги гьедин гьабилаанин абураб жоялда ракI чIчIанила гьассул. ГIодулей-чIвадулей эбелги тун анила вас витIун. ИчIго-анцIго къо иналде бидулI белъараб ретIелги бачIанила. КIиявго васассдассаги махIрумлъун, кIудияб ургъалида инел рукIанила ХIожолги чIчIужуялълъулги сонал. ГIажаиблъун гIадамалги рукIанила гьазда, бералда бихьулаго чIвазе лъималги ритIун, гьаз гьабураб жоялълъухъан абун. ГIадамаз толел рукIинчIила гьал цо хIалалда гьеб-доб бицунаго. Гьаб къагIидаялда анила 14-15 сон. Ххабар гьечIого цо нухалълъ гуржияссул кагъат бачIанила. Лъималазул хобалдеги рахине, гьел ракIалде щвейги гьабизе, дагьаб мехх жидехъги базе рачIаян ахIулел рукIанила гьасс гьал. Ургъанила росс-лълъади ун лълъикIдай, лълъикI гуродай абун. КIиязулго ракI иналда тIад рекъолеб букIанила, амма гIадамаз васвасал ккезарулел рукIун руго. – Валлагь, гьанже гьев тушманассде тIадеги ани, анкьабго рекъезабила нужецца, – ян абулеб букIанила гьаз. ГIадамазухъги гIинтIамичIого, кьабун рахъун анила гьал. Лъималазул хобалгIаги гурищ нилIеда рихьилелан абураб пикруялълъ рекIее парахалъи бачIунеб букIанила гьазул. Щванила гьал гуржиялълъе. Ххош-баш гьабунила гьалбадерицца, цинги гьазул ракI гьалакго букIинги лъан, гьаз ХIожоги чIчIужуги ахикье рачанила. Рихьизарунила гьаз хобал. Бугила цо кIудияб хоб; гьелда асскIоб кIиго гьитIинаб хобги бугила. ТIад тIугьдул чIчIун берцинго къачIанги ругила гьал. ХIожоги гьессул лълъадиги ракIалги пашманлъун, дагьал гIодизеги гIодун, гьалбадерицца рокъоре рачанила. Балагьанила, бугила кIудияб тIутI къачIан, тIутIалда тIад квана-гьекъолеб жоялълъул камураб жо гьечIила. Ссверун гIодор чIчIун гIемерал цIакъ аваданал кепал гьалбал ругила. Гьал гIодор чIчIезе бакIги бугила хIадур гьабун тун. ГIодор чIчIезарун гьалбалгун киназго лълъарал цIунила. Рукъалълъул бетIерасс борххун жиндирго лълъаргун, жиндир гьитIинаб меххалдасса нахъе Унссоколосса ХIожолгун ккараб щинаб жо бицанила, цинги абунила гьасс: – Дир вас ХIожол ХIожоцца ххатIаялдалъун чIвана. ХхатIаялдалъун гуро ургъунго чIван вукIараваниги дицца гьессул кIиявго васали щай гурин, цонигияссда килищ хъвазецин ракIалде ккелароан. Бидул тушманлъиялда тIад рекъоларо дун. ЛекIаз бидул тушманлъиялълъул гIадат кутакалда хIалтIизабула. Гьедин гуребани, ХIожол ХIожоцца дихъе чIвазе васал ритIилаанищ? Кидаго ритIилароан. Дицца гьел чIван рукIараланийищ лълъикI букIинебан, ялъуни дицца гьабураб куцищ лълъикI? Ургьун рихье нуж, – анги абун, гьасс абунила жиндирго чIчIужуялда, – рачея гъол гьанире – ян. Инеги ун, чIчIужу доб рокъосса цIубараб моцIцI гIадав кIиго васги цадахъ гьавун ячIанила. НуцIцIил кIалтIа рахъун чIчIун гьалги тун, гьай жиндирго бакIалда гIодой чIчIанила. – Гьале нужер кIиявго вас, – ай абунила гуржиясс ХIожодаги чIчIужуялдаги, – нужер гIадат билълъинабун букIарабани, жакъа нужеда гьал рихьизе рукIинчIо. Гьеб меххалълъ цинги ХIожоги чIчIужуги роххуцца гIодулаго ххурхханила кIиявго васассда. ЛълъикIалан меххалълъ жалго гьалги тун ссихI къотIун чIчIанила гьанир рукIарал гьалбал. Гьазухъ балагьун ракI къварилъанила гьазул. Цинги гьалги гIодорчIчIун паракъалъараб меххалълъ гуржиясс ххадуб кинаццаго гьураги ахIун гьазул савлухъ гьекъанила. КIиабилеб лълъар борххараб меххалълъ гуржиясс абунила: – Дицца гьаб лълъар гьекъола ХIожол ХIожолълъги гьессда релълъарал цогидал лекIазулълъги бугеб яхIгун намус, гъорлI бидул тушманлъи гьечIого, наслуялълъ наслуялълъухъе кьолаго, азарго соназ чIахъулаго айги абураб жоялълъе гIолон. Гьассул гьаб каламалда киналго разилъун гьураги ахIун гьекъанила. Ххадуссеб лълъар ХIожол ХIожоцца борхханила: гьасс абунила: – АнцIила щугониги соналълъ диццаги дир чIчIужуялълъги бидул тушманлъиялълъул кьогIлъи чIамуна. АнцIила щуябго соналълъ гьав чиясс нижер кIиявго вас чIваравилан абураб жоялълъ бухIулеб букIана нижер ургьимесс. Бидул тушманлъи бидул ваццлъиялде буссинабизе рекIел хIал гIурав бахIарчияссул савлухъ гьекъола дицца, – абун. Гьазул гьаб квана-гьекъей бертаде буссанила. Лъабго сордо-къоялълъ гьабунила гьаз бертин-ссухIмат. Ункъабилеб къоялълъ жалго ххутIараб меххалълъ абунила гуржиясс: – Ле, гьудул, ХIожо! КIиго васгун мун, цониги гьечIого дун, бегьилищ гьедин. – Бегьиларо. – Кинха гьабилеб? – Дуццаго бокьараб хIукму гьабе, гьаб ишалда жаниб дир щибниги рагIи бицине бакI гьечIо, дун дуе мукIурав вуго. – Дие бокьарабги гьабиларо, рачIа васазе бокьараб гьабизин. – РачIахха. АхIанила васал. Гьикъанила гьазда гуржиясс: – Нижги руго нужер эбел-эмен, гьалги руго. Бокьарав гьазда цадахъ а, бокьарав нижеда цадахъ чIчIа. Гьас гьадин абураб меххалълъ кIудиявав гуржияссдеххун балагьун гьиманила, гьитIинавав эбелалдеххун къанила. ЧIаго ратаралдасса нахъе кIиявго гьанив таниги ургъел щибанги абун, ХIожоги чIчIужуги гьитIинав васги вачун магIарухъе руссанила. ГIорхъоде щвезегIан гьал тIоритIизе гуржиявги кIудияв васги рачанила.
- Ралъдал чу | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
РАЛЪДАЛ ЧУ ВукӀанила, вукӀинчӀила цо пачахІ, пачахӀассул лъабго васги вукӀанила. Щибаб къоялълъ радал гьел инссухъе тӀаде унаанила, щибдай гьесс абила, щибдай гьесс малълъилаян лъазе. Цо къоялълъ тӀаде аралълъур, гьезда эмен ватанила накІкӏул парча тӀад бигъарав гӀадин, цӀакъ пашманго. «Дуе лӏугьараб щиб, рагӀараб квешаб ххабарищ, тӀаде гӀунтӀараб кIудияб балагьищ, щай мун къварилъун вугев?» - ян гьикъанила гьез гьессда. РагӀараб квешаб ххабарги гурин, тӀаде гӀунтӀараб кӀудияб балагьги гьечӀин, дун ургъалилӏе реххараб жо бугин араб къасси дида бихьараб макьуян абунила инссуцца. БитӀун ралъдалӏа къватӀибе бакъ баккулеб гӀужалълъ, бакъалда ххадуб ралъад рагӀалде цо гӀазухъахӀаб чу кӀанцӀанин, бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дунялги ссверун, гьеб нахъеги ралъдалӏе тӀерхьун анин, гьелда ххадуб ралъдал тӀиналде бортун араб гӀадин, дир ракІги лӏугьанин. Гьаб дир улкаялдасса, тӏолго дунялалдасса дир ракӀ анин, гьеб макьу бихьаралдасса нахъеян макьуги бицун, гӀенеккун чӀчӏанила пачахІ. Гьеб чода ххадур ниж ина, я эб батун, я хун, кӀиялълъулго цояб лӏугьинчӀого ниж нахъруссинарин, рекӀанила лъабавго вас чода, цо-цо чу ххадуб цӀцӏанги бачанила, квине гьуинаб, босизе тӀутӀаб (бигьаяб) щинаб жоги тӀадкъан, кьабунила гьанже гьез. Лъабабилеб къоялълъул къалъул гӀужалда гьел щванила нух лъабиде бикьулеб бакӀалде. Нухбикьуда чІван зани бугила, зонода хъван бугила: «Кваранаб нухалълъги, квегӏаб нухалълъги арассе щибго хӀинкъи гьечӀо, гьоркьохъеб нухалълъ арав я хвела, я, талихІ кьун, нахъвуссина», - ян. КӀудияв вацц кваранаб нухалълъ валагьанила, гьоркьохъев квегӀалълъ валагьанила, гьитӀинасс битӀухъе бацӏанила. Киве мун, хвел-рахъин лъалареб нухалълъ унев, нижер цояссда ххадув вилълъаян, ахІданила гьессде ваццал. КІваричӀин, Бичасс хъвараб букӀине батилин, талихӏги гьорол къоялълъ хӀелкил рачІчӏ гӀадаб жойин, щиб лъалеб дидеххун хъвалебниги, а нужго, Бичассул цӀцӏобгун дун вуссинчӀони, лӏугьа-бахъараб инссудаги бицеян, жаваб кьунила гьитӀинасс. ГӀемераб дагӀба-къецц ваццазги гьабичӀила, кьабун бухъизабун, гьевги анила. Вилълъанила гьев, вилълъанила, гӀемерав вилълъанила, дагьав вилълъанила, къасси вилълъанила, къад вилълъанила, нилӏер мегӀер цо танила, чияр мегӀер кӀиго танила, гванзал рохьал къотӀанила, гъваридал кӀкӀалал тиранила, щванила гьев цо заманалдассан цӀакъ ризаб, гъамилараб, кидаго гӀощтӀол гьаракь рагӀичӀеб цо рохьове. Ссверданила гьев гьенив, анкьицца ссверданила, моцӀцӏицца ссверданила, кӀиго, лъабго, ункъо моцӀцӏицца ссверданила, я гӀадамассул лъалкӀ гурила, я гӀадамассул рукӀел гурила, я рохьосса къватӀибе нух гурила. Вакъанила гьев, къечанила, тӏад ретӏараб ретӀел хохонила, гъоркь рекӏараб чу хванила, яргъида кьаву чІванила, рухІалдасса хьул къотӀанила. Гьеб хӀалалда вукӀаго, цо къоялълъ гьессда гӀадамассул цо лъалкӏ батанила. Натӏ гӀеблъуда бугила гьелълъул, лъабго натӀ ххалалъуда бугила, натӀиццаниги ракьулӏе унги бугила. «Хвани - хвезеги, вахъани вахъинеги», - ян абун, вилълъанила гьев лъалкӀда ххадув. РохьтӀагӀалиде щванила, балагьанила: цӀцӏанбитӀараб авлахъ бугила, авлахъ бакьулӏ зобалазде араб анкьго хъала бугила, хъулби ссверун маххул хьопалълъ хьухьараб чармил гарас (гӏер) бугила, гарас рикӀкӀун тӀад къазабун гӀадамассул бетӀерги бугила. Щванила гьев рагьтӀе. Жаниве лӏугьанила: йигила гъассда гӀодойикӀун цо залимай, мокърукь тункулей гӀадай чӀчӏужугӀадан. Вортун ун, гьесс гьелълъул керен кӀалдиб чІванила. - Мун дир васлъана гьанже, дун дур эбеллъана, гуревани, дицца гьадин гьавилаан, - инги абун, кӀихӀи тӀезеги тӀун, рохъдолӏги ччуччун, кӀкӀун биччан танила гьелълъ гъассда букӀараб кету. Цинги гьелълъ васассда гьикъанила: - Мун щиб мухъалълъул чи, кисса вачӀарав, къваригӀел щиб? - ан. Жиндирго къваригӀел букӀа, нухда лӏугьа-бахъараб букӀа - кинабго жо бацІцІад гьабун бицанила асс. - Анкьго вас вугев дир, анкьавгоги нартав, щибаб къоялълъ чанаре хьвадула гьел, жакъаги ун руго, нахъруссине меххги щун буго гьезие. Мун гьаб цогъронивниги ваххчун вукӀа, гурони, вихьун ххадув гьез мун теларо, дур мурадлъун бугеб жо дицца гьезда гьикъила, цояссданиги лъачIого ххутӀилареб батилин гьеб, - илан абунила хъартицца. Цогъронив васги ваххчанила, рагьтӀа руруй бахъанила. РачӀанила нартал. Щивассул гъажалда лъун чинаридул гъветІ бугила, щибаб гъотӀода цо-цо чанаоцги бугила. РагьтӀе щвараб меххалълъ, гӀодор кьабун, тӀахьтӀи гӀадин, гъутӏби гъуранила гьез, хьаг лъеян эбелалдеги ахІданила. Гьаби гӀадин, ссентӀолаго, лӏугьанила анкьавго вас жаниве: «Гӏадамассул махІ буго, гӀадамассул махІ буго», - ян абулаго. - Нуж тӀурунищ, гьаглъунищ, - ан семанила гьезде эбел, - кисса букӀунеб гьаниб гӀадамассул махІ, кир-кирниги ссвердулаго, нужедего бахун батила эб. Белъун гьанги лъунила эбелалълъ гьазда ццебе, асскӀобго цо рукъ гӀанаб чӀагӀдал рагІги чӀчӏезабунила. Кванан, гьекъон рахъараб меххалълъ, эбелалълъ гьезда гьикъанила: - Ралъдалӏан къватӀибе бачӀунеб, бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дунял ссверулеб чу бугищ? - ан. Анлӏавго кӀудияв нартав кӀалъачӀого чӀчӏанила. Бищун гьитӀинасс абунила: - Бугеб, эбел, гьединаб чу, гьелълъул бетӀергьанчиги ралъдал тӀиналда вугев ралъдал пачахІ. Щибаб къоялълъ, ралъдалӏан бакъ баккулеб гӀужалълъ ракъдаде кӀанцӀула гьеб чу. Бер къанщизегӀан сагӀаталълъ лъабцӀцӏул дунялги ссверула гьелълъ, ралъад рагӀалда бугеб цо рахьдал хӀоринибги чвердон, салуда тӀад гебегахъдизеги гебегахъдула. Зобалазде гӀаркьалаби риччараб цо чинари бугеб, гьелда тӏогьиб гьеб чода лъолеб меседил кьилиги, гьелда балеб гӀарцул чолорхъоги бугеб, - ан. - Гӏелин гьанже, кьижа, ссваканги ратилин, - ан абунила эбелалълъ васазда. Веганила, кьижанила анкьавго нартав. Гьелълъ гъов вас цогъронисса къватӀиве вачанила, ретӀине ретӀелги кьунила гьессие, рекӀине чуги кьунила, базе ярагъги кьунила, къваригӀараб щинаб жоги кьун, ралъдахъе нухги бихьизабун, анила валагьизавун. Эбелалда гьитӀинав нартасс доб чол ххабар бицунаго, кинабго жо гьессда рагӀун букӀанила. Гьанже вилълъанила гьев, кьабанила, щванила ралъдал рагӀалде. РагӀалда цо гвенд бухъанила гьесс, гьениве лӏугьун, бер къанщичӀого, сордоги борчӀанила. Рогьалил хъахІлъиги банила, ралъдалӏан къватӀибе бакъ баккулеб букӀанила, бакъалда ххадубго цун, ралъад рагӀалде чуги кӀанцӀанила. Бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дуниялги ссверун, рахьдал хӀоринибги чвердон, ралъдал рагӀалда салуда тӀад гебегахъдизе лӏугьанила гьеб. Тирщун тӀадеги вахъун, борохь гӀадин жеманила вас гьелълъул горбода, лъабцӀцӏул хъахӀилаб зобалда тункуледухъ, эххеде кӀанцӀанила чу, лъабцӀцӏул гӀодоб речӀчӀун, чІчӏегІераб ракь ссородизабунила, кинго биччачӀила васасс ккураб габур. - Бергьана мун дидасса, гьанже дун дурлъана, дида кьилиги лъе, чӀолохъжоги бай, тӀад мунгоги рекӀа, - ян абунила чоцца. ГъотӀодасса босун кьилиги лъунила гьелда гьесс, чӀолохъжоги банила, тӀад живгоги рекӀанила. - Дуцца щиб малълъилеб гьанже, дицца щиб гьабилеб? - ян гьикъанила чоцца васассда. - Ваче дун дир инссул улкаялде, - ян абунила васасс. Боржунеб жоялълъул гӀадаб рилълъин бачанила чоцца. Рилълъанила гьел, рилълъанила, тӀерхьун бакъги анила, рукӀкӀанила, бецІцӏлъанила, лахІчӀчӏегІераб сордолъанила. ГьебсагӀаталълъ нахъеги гвангъун анила зоб-ракь. Абго щиб, гӀаламат абун, ццеве валагьанила вас: цӀцӏанбитӀараб, балагьани, бер ссвакалеб авлахъ бугила, бакьулӏ кунчӀулеб цо жо бугила, жибго бакъуцца гӀадин гьел канлъи биччалеб бугила. Щванила гьел гьелде тӀаде, бугила меседил хӀули. - Босилищ дицца гьаб, босиларищ? - ан гьикъанила васасс чода. - Босаниги, рекӀекълъизе вуго мун, босичӀониги ракӏ бухӀизе буго дур, - ан абунила чоцца. БосичӀониги, рекӀекълъулеб, босаниги ракӀ бухӀулеб гьеб босунго лълъикӀин абун, тӀогърода хӀулиги къазабун, вилълъанила гьев. Щванила цо шагьаралде. Шагьар ссверун галан бугила, каваби къан ругила, жаниве лӏугьине дунялалда бакӀ гурила. Шагьаралълъул рагӀалда цо ицц батун, гьенив рещтӀанила вас. Чоцца гьессда абунила: - Дуцца гьанже дун ххарда кваназе биччай. КъваригӀараб меххалълъ, гьаракь гьабе дуцца, анкьго мегӀер бегун добеххун бугониги, бер къанщизегӀан, дун дуда ццебе чӀчӏезе буго, - ян. Биччанила гьесс чу. Гъоркь тӀенкги тӀамун, къаданиб кьилиги лъун, тӀад буртинаги бан, тӀогъродасса бахъун, меседил хӀулиги кисиниб лъун, кьижанила гьев, гӀемераб меххалълъ кьижичӀев чи гӀадин. Къад гӀадин, сордо гвангъун бихьидал, доб шагьаралълъул ххалкъ цӀакъ хӀинкъанила, пачахӀассухъе кӀанцӀанила, гьаб щиб гӀаламат абун. Гьездассаги цӀакъ живго пачахІги хӀинкъанила. Гьесс ссверун хъаравуллъи тӀамунила, рогьинегӀан кьижичӀила. Рогьараб меххалълъ, нусго чи витӀанила, рекӀа-рорчун, шагьар тун къватӀире. Жеги ворчӀичӀого ватанила гьезда гьев вас. Тунка-гӀусун вахъинавунила, пачахӀассухъе вачанила. - Мун щив, дур росу-ракь, кисса щварав, кинав чи мун? - ан гьикъанила пачахӀасс. - Дидагоцин лъаларо дун киссаяли, гьадинго чӀалгӀаде дунял ссверулев чи вуго дун, ан абунила васасс. - Гьаб араб сордоялълъ дунял гьададин гвангъиялълъе гӀила щибали лъалищ дуда, мун къватӀивги вукӀанин? - илан гьикъанила пачахӀасс. - Гьелълъул гӀаламат гьаб буго, - ян абун, кисинисса бахъун, меседил хӀули кьунила гьесс пачахIассухъе. ГӀадамасс бицун бажарулареб, дунял бижаралдасса кидаго гӀадамассул ккечӀеб гӀассияб рокьи кканила пачахӀассул доб хӀули тӀасса бортараб рухІчӀаголъиялълъухъ. - Кисса балагьунги, гьаб хӀули тӀасса бортараб рухІчӀаголъи щвезабе дуцца дихъе, гурони, дицца дур бетӀер къотӀун реххила, - ян абунила пачахӀасс. Жиндие гьерессилъиларедухъ, эбелалълъул рахь хӀарам гьабун, гьедизеги гьавунила пачахӀасс гьев. ГӀодобе бетӀерги къулизабун, вилълъанила вас. Шагьар тун къватӀиве щвараб меххалълъ, цо гӀассияб гьаракь гьабунила гьесс. Кисса бачӏарабали лъачӏого, ццебе чӀчӏанила хъахӀаб чу. - Дур пашманлъи щиб, къваралъи щиб? - ан гьикъанила чоцца васассда. Гьессги бицанила пачахӀассулгун лӏугьа-бахъараб жо. - Расги къварилъуге мун, гьелдасса бигьаяб нилӏее щиб букӀунеб. Гъоб дун жаниб чвердараб хӀор лъалищ дуда? Ралъдал пачахӀассул лъабго яс йиго, щибаб къоялълъ къалъуде бакъ бахараб гӀужалълъ, маккаллъун рахъун рачун, рагӀалда жидерго макказул тӀомалги тӀасса рахъун, гъоб хӀоринир чвердола гъол. Бищун гьитӀиналдасса бортараб хӀули буго гъоб нилӏеда батараб хӀули. ХӀор ссверун ругел хъархъазулӏ ваххчун вукӀа мун, жанире дол лӏугьараб меххалълъ, кӀутӀун босун, лъороб лъе дуцца бищун гьитӀиналълъул тӀом. Лълъедон рагӀалдеги ячӀун, гьелълъ дуда гьарила тӀом нахъе кьеян. КигӀан гьараниги, дуцца гьеб кьоге, мун гьелълъухъ гӀенеккуге. Цинги дуцца абураб гьабичӀого, дуда ххадуй йилълъинчӀого, гьелълъул чара букӀине гьечӀо, - ян абунила чоцца. РекӀанила вас, цин кӀанцӀаралълъ чоцца хӀорихъе щвезавунила. Хъархъазда гьоркьов ваххчанила гьев. Къалъул гӀужалда ссурссуриялда бачӀун, хӀорил рагӀалда лъабго микки рещтӀанила. ТӀасса макказул тӀомалги рахъун, нур гӀадал мусудул лӏугьун, рукъун гьел хӀоринире анила. КӀанцӀун вахъун, лъороб къазабунила васасс бищун гьитӀиналълъул тӀом. Лълъедон рагӀалдеги ячӀун, гьитӀинай яс гьарданила гьессда тӀом нахъе кьеян. КигӀан гьараниги, гӀенеккичӀила гьев, балагьичӀила. Жиде-жидер тӀомалги ретӀун, йоржун анила кӀияйго кӀудияй яцц. Гьезда ххадуй ахІданила гьитӀинай: - Нужедасса ятӀалъулей йиго, дун гьанже гьаний ххутӀулей йиго. Дир къайи лъураб гъамассгӀаги нужецца гьанибе щвезабе, - ян. ЛъабцӀцӏул чу кӀанцӀизегӀан нахъруссунги рачӀун, хӀорил рагӀалда зар гӀанассеб маржаналълъул гъамассги лъун, йоржун хъахӀилаб зодое тӀерхьун анила кӀияйго яцц. Дицца ретӀел ретӀинегӀан, довеххун вуссаян абунила ясалълъ васассда. Гьабан абизе лъалареб, гвангъараб цо тамашаяб ретӀелги ретӀун, чӀчӏанила гьей гьессда ццее. Нахъа ясги лъун, рекӀанила вас чода. - Кие дуцца дун ячуней йигей? - ан гьикъанила ясалълъ. - Гьаб нилӏеда ццебе бугеб шагьар бихьулищ дуда, гьаб шагьаралълъул пачахlaсce кьезе ячуней йиго дицца мун, - ан абунила гьасс. - Гьессие кьечӀого, дуццаго кин ячунарей дун, - ан абунила ясалълъги. Васасс жиндиргоги пачахӀассулги лӏугьа-бахъараб къисса бицанила. Гьелълъул бицунаго, гьел шагьаралълъул рагӀалде щванила. Гьенибе чуги биччан, ячун ясгун, пачахӀассухъе анила гьев. Ясалда бер чІварабго, зар-заргӀанассеб гӀунила пачахӀассул кӀиябго бер, мегеж тӀуртӀуданила, цаби цоцазда кьабунила, щибго рагӀи нахъе тӀамичӀого, яс ячине къассд гьабунила гьесс. - Мун гӀадав херассе дун ячӀунаро, къого сон барав гӀолохъанлъун вахъа мун, гьебмеххалълъ ячӀина дун дуе, - ян абунила ясалълъ. - Араб гӀумру дицца кин нахъбуссинабулеб? - абунила пачахIасс. - Шагьаралълъул рагӀалда кӀикъоялда анцІго натӏ гъварилъуда бугеб гвенд бухъизабе дуцца. Гьеб гвенд рацІцІадал багӀарал гӀачиязул рахьдал цӀезабун, гьелда жанив чвердани, къого сон барав гӀолохъанчилъун вахъина мун, - ан абунила ясалълъ. - Дир улкаялдаго ратиларо гьеб гвенд рахьдал цӀезабизегӀан гӀемерал багӀарал гӀачи, - ян абунила пачахӀасс. - Ма гьаб, - ан абун, ясалълъ, кисинисса бахъун, цо гьитӀинаб квербацІцІ кьунила пачахӀассухъе. - Гьабги босун, цо чи витӀе дуцца гьаб нилӏеда ццебе бугеб магӀарде. ТӀогьиве вахараб меххалълъ, гьеб хьвагӀеян абе дуцца гьессда, гьаб мухъго цӀелебин багӀарал гӀачиязул. ТӀолго шагьар гвенд бухъизе тӀамунила пачахIасс. Цо чи, квербацІцІги кьун, магӀарде витӀанила. ТӀогьиве вахараб меххалълъ, хьвагӀанила гьесс квербацӏцӏ - рохьаздасса, мугӀруздасса - азарго батӀи-батӀияб бакӏалдасса, гӀергӀедулаго, кӀанцІанила багӀарал гӀачи шагьаралълъул рагӀалде. РечӏчӀанила ясалълъ гьел, цӀунила гвенд. Цинги хӀинкъанила пачахІ, кІвечӀила жаниве лӏугьине. - Раче гьанире цо бищун херал росс-лълъади, - ян абунила ясалълъ. Вачун вачӀанила нусго сон барав гӀадав, къуларав, беразда канлъи бихьуларев цо чиги эхӀединайго чӀчӏужуги. Рукъизарунила ясалълъ гьел гвандинир къого сон барав гӀолохъанчилъун херав вахъанила, анцӀила щуго сон барай яс-гӀаданлъун херайги яхъанила. Тӏокӏав дове-гъовего балагьичIого, кӀанцӀун виччан танила пачахӏ гвандиниве - тӀухьи гӀадин, тӀиналдеги ун, гьабсагӀатги вугила гьенив. Лълъикӏ букӀаян доб шагьаралълъул агьлуялдаги абун, вахун чодеги, нахъа ясги рекӀинаюн, тӀуризабунила васасс хъахӀаб чу. Щванила цо шагьаралде. Базаралде вилълъанила гьев, къваригӀараб-тараб жо босизе. Ватанила жиндирго кӀудияв вацц: хохораб, магъкьаххараб ретӀелги ретӀун, бадисса кьерги ун, бетӀербахъиялълъе чед бичулев вугила. Рохханила, къочаранила цоцазда гьел, бицанила цоцазда жиде-жидер лӏугьа-бахъараб иш. РетӀине ретӀел босанила гьесс ваццассе, рекӀине чу кьунила, базе ярагъ букӀинабунила, цадахъ вачанила. Цо заманалдассан, унаго, щванила гьел цо росулӏе. Анила гьел базаралде - ватанила гьоркьохъев ваццги: дунялалда дарманги къосун, къасабчияссда ццеве хъазахълъун чӀчӏун, гьан бичулев ватанила гьессда гьев. Босанила гьессиеги къваригӀан щинаб жо. Цадахъ гьевги вачун, вилълъанила гьанже лъабавго вацц, цадахъ ясги йигила гьезда. Чӏор битӀун, инссул улкаялде балагьун рачӀунел ругила гьел. КӀудиял ваццазул гьанже жахІда кканила гьитӀинассдеххун. «Нилӏ дунялалдаго кин рукӀунел, инссуда кин рихьулел, руччабазда кин рихьулел, я нилӏго хвезе ккун руго рокъоре щвезегӀан, ялъуни гьав тӀагӀинавизе ккун вуго нилӏецца», - ян гаргаданила гьел. Гьоркьохъев ваццасс абунила: - Нилӏеда ццебе лъабкъого натӀ гъварилъуда бугеб, жаниб лълъимги бакъвараб цо гвенд буго, гьелда тӀаде щолаго, нилӏецца ваццассда абун лълъикӏ, рачӏа чуял тӀамизеян. ТӀамун унаго, гьоркьовеги ккезавун, витӀун гвендалде тӀаде вачина нилӏецца гьев, чуги живгоги гьениве жаниве реххун ина, - ян. КӀиявго вацц гьелда рекъанила. Гвендалде тӀаде щолаго, гьессда ваццаз абунила: - РачӀа чуял тӀамизин, - илан. Велъанхъулаго, гьесс абунила: - Бер къанщизегӀан меххалълъ лъабцӀцӏул дунял ссверулеб дир чугун нужер чуял кин рекерулел? - ан. КІваричӀин, дур чол бекеригӀаги бихьилеб батила нижедаян абун, гьез лъабассго чуял тӀамунила. Гьоркьовеги ккезавун, битӀун гвендалде тӀаде вачанила гьез гьев. ТӀаде щвараб меххалълъ, чІвараб магӀ гӀадин хъахӀаб чуги чӀчӏанила, дегӀенасса жаниве реххун васги анила. Гьанже гьессул чу кквезе рортанила кӀудиял ваццал квер бегьулаго, берзукьа тӀерхьун анила чу. Ячун ясгун, рилълъанила гьанже гьел. Щванила инссул шагьаралде. Сида жаний ясги тӀамун, тӀад хъаравуллъиги тун, рилълъанила гьел инссухъе тӀаде. Цо гьерссида тӀад анцІго рекъезабунила, анцІгоялда тӀад нусго лъунила, дуда макьилӏ бихьараб чуги дуниялалдаго гьечӀеб жо букӀун бугин, зобалда гъоркь, ракьалда тӀад, ниж щвечӀеб, нижецца хъирщичӀеб бакӀги ххутӀичӀин, я гьеб чу бихьарав, я лъалев, я рагӀарав щивниги инсан нижеда ватичӀин абун рекъезабунила. Чуго кІваричӀин дие, нужер гьитӀинав вацц киве араван гьикъанила инссуцца. Гьез абунила: - Унгеян ахІдолел нижги тун, цо квешаб, хӀинкъараб нухалълъ ана гъов, тӏокӀалълъ вихьичӀо нижеда, хваравги лъаларо, вахъаравги лъаларо, - ян. Эмен цӀакъ пашманлъанила, шагьаралдаго рукъ рикІкӀун, магӀу лъунила, улкаялълъго чӀчӏегІер банила. Гьанже кӀиявго ваццасс дой яс мукӀур гьайизе тӀаде хьвадизаюнила цо къоролай, дие ячӀаян цоясс, дие ячӏаян цогиясс. Гъой ясалълъ лъазабунила, чадилги гьаналги базар гьабулел чагӀазе дун ячӀунароян. Дун ячунев чи дидаго лъала, нужго цӀцӏодор рукӀаян. Балагьун йикӀанила гьей цо къоялълъ сивул гордуниссан, кӀиябго берги гьелдеххун буссинабун, хъахӀаб чу бугила авлахъалда жен-жедулеб. Гьелълъ гъолде квер хьвагӀанила - горда гъоркье бачӀанила чу. Дур бетӀергьанчи кив вугеван гьикъанила гьелълъ. - Гвандиниве реххун вугеблъи лъаларищ дуда, - ян абунила чоцца. - Гьев тӀаде вахъизе сабабго букӀунарищан гьикъанила гьелълъ. - Цояб бетӀералда кӀичӀги гъун, лъабкъого натӀ ххалалъуда бугеб квар реххе дуцца дир горбоде, - ян абунила чоцца, - кӀичӀицца дир габур ккуни, вахъила дицца гъов тӀаде. Ясалда асскӀоб квар батичӀила, ракьанчІван жиндирго гъалалги къотӀун, кьуранила гьелълъ лъабкъого натӀ ххалалъуда бугеб квар. Цояб бетӀералда кӀичӏги бан, анила гъоб чоде реххун. Хапун ккунила кӀичӀицца чол габур. ТӀуранила хъахӀаб чу гьенисса, щванила гвенд бугеб бакӀалде тӀаде. Бегьанила жанибе квар, ккунила васасс гъоб, туркӀанила гьелълъ, вахъун вачӀанила тӀаде вас. Тириго чода рекӀанила гъов, боржараб хӀинчІчӏ гӀадин, щванила гьел шагьаралде. Ваццазда гьев вачӀунев вихьанила, цояв бакъбаккуде тӀуранила, цояв бакътӀерхьуде лӏутанила, гьабсагӀатги унелго-унел ругила. ХӀассил, пачахІ вохханила, ххалкъ бертаде жубанила, васасс яс ячанила. Гьелда дир маргьаги лӏугӀарабхха! ra;dal xu wujanila, wujinzila co <axa\, <axa\aSul ;abgo wasgi wujanila. ?ibab qoya' radal hel inSu]e Tade unaanila, ?ibday heS abila, ?ibday heS ma'ilayan ;aRe. co qoya' Tade ara'ur, heRda emen watanila naJul <arxa Tad biGaraw fadin, vaq <a/mango. «duye `uharab ?ib, rafarab kwe/ab {abari?, Tade funTarab Judiyab balahi?, ?ay mun qwari;un wugew&» - yan hiqanila heR heSda. rafarab kwe/ab {abargi gurin, Tade funTarab judiyab balahgi hezin, dun urGali`e re{arab Do bugin arab qaSi dida biFarab mapuyan abunila inSuCa. biTun ra;da`a qwaTibe baq baKuleb fuDa', baqalda {adub ra;ad rafalde co faRu]a\ab xu janvanin, ber qan?iRefan me{a' ;abVul dunyalgi Swerun, heb na]egi ra;da`e TerFun anin, helda {adub ra;dal Tinalde bortun arab fadin, dir rajgi `uhanin. hab dir ulkayaldaSa, Tolgo dunyalaldaSa dir raj anin, heb mapu biFaraldaSa na]eyan mapugi bicun, feneKun Zanila <axa\. heb xoda {adur niD ina, ya eb batun, ya [un, jiya'ulgo coyab `uhinzogo niD na]ruSinarin, rejanila ;abawgo was xoda, co-co xu {adub Vangi baxanila, kwine huinab, bosiRe TuTab (bihayab) ?inab Dogi Tadqan, pabunila hanDe heR. ;ab~abileb qoya'ul qa;ul fuDalda hel ?wanila nu[ ;abide bipuleb bajalde. nu[bipuda zwan Rani bugila, Ronoda ]wan bugila - «kwaranab nu[a'gi, kwefab nu[a'gi araSe /ibgo \inqi hezo, horpo]eb nu[a' araw ya [wela, ya, tali\ pun, na]wuSina», - yan. judiyaw waC kwaranab nu[a' walahanila, horpok]ew kwefa' walahanila, hiTinaS biTu]e bavanila. kiwe mun, [wel-ra]in ;alareb nu[a' unew, niDer coyaSda {aduw wi'ayan, a\danila heSde waCal. jwarizin, bixaS ]warab bujine batilin, tali\gi horol qoya' \elkil raZ fadab Doyin, ?ib ;aleb dide{un ]walebnigi, a nuDgo, bixaSul Vobgun dun wuSinzoni, `uha-ba]arab inSudagi biceyan, Dawab punila hiTinaS. femerab dafba-qeC waCaRgi habizila, pabun bu]iRabun, hewgi anila. wi'anila hew, wi'anila, femeraw wi'anila, dahaw wi'anila, qaSi wi'anila, qad wi'anila, ni`er mefer co tanila, xiyar mefer jigo tanila, gwanRal roFal qoTanila, Gwaridal Jalal tiranila, ?wanila hew co RamanaldaSan vaq riRab, Gamilarab, kidago fo?Tol harap rafizeb co roFowe. Swerdanila hew heniw, anpiCa Swerdanila, moViCa Swerdanila, jigo, ;abgo, unqgo moViCa Swerdanila, ya fadamaSul ;alj gurila, ya fadamaSul rujel gurila, ya roFoSa qwaTibe nu[ gurila. waqanila hew, qexanila, Tad reTarab reTel [o[onila, Gorp rejarab xu [wanila, yarGida pawu zwanila, ru\aldaSa Ful qoTanila. heb \alalda wujago, co qoya' heSda fadamaSul co ;alj batanila. naT feb;uda bugila he'ul, ;abgo naT {ala;uda bugila, naTiCanigi rapu`e ungi bugila. «[wani - [weRegi, wa]ani wa]inegi», - yan abun, wi'anila hew ;aljda {aduw. roFTafalide ?wanila, balahanila, VanbiTarab awla] bugila, awla] bapu` RobalaRde arab anpgo ]ala bugila, ]ulbi Swerun ma{ul Fo<a' FuFarab xarmil garas (fer) bugila, garas riJun Tad qaRabun fadamaSul beTergi bugila. ?wanila hew rahTe. Daniwe `uhanila, yigila GaSda fodoyijun co Ralimay, moqrup tunkuley faday ZuDufadan. wortun un, heS he'ul keren jaldib zwanila. - mun dir was;ana hanDe, dun dur ebel;ana, gurewani, diCa hadin hawilaan, - ingi abun, ji\i TeRegi Tun, ro]do`gi XuXun, Jun biXan tanila he' GaSda bujarab ketu. cingi he' wasaSda hiqanila - mun ?ib mu]a'ul xi, kiSa wazaraw, qwarifel ?ib& - an. Dindirgo qwarifel buja, nu[da `uha-ba]arab buja - kinabgo Do baVad habun bicanila aS. - anpgo was wugew dir, anpawgogi nartaw, ?ibab qoya' xanare Fwadula hel, Daqagi un rugo, na]ruSine me{gi ?un bugo heRiye. mun hab coGroniwnigi wa{xun wuja, guroni, wiFun {aduw heR mun telaro, dur murad;un bugeb Do diCa heRda hiqila, coyaSdanigi ;azogo {uTilareb batilin heb, - ilan abunila ]artiCa. coGroniw wasgi wa{xanila, rahTa ruruy ba]anila. razanila nartal. ?iwaSul GaDalda ;un xinaridul GweT bugila, ?ibab GoToda co-co xanaocgi bugila. rahTe ?warab me{a', fodor pabun, TaFTi fadin, GuTbi Guranila heR, Fag ;eyan ebelaldegi a\danila. habi fadin, SenTolago, `uhanila anpawgo was Daniwe, - «fadamaSul ma\ bugo, fadamaSul ma\ bugo», - yan abulago. - nuD Turuni?, hag;uni?, - an semanila heRde ebel, - kiSa bujuneb hanib fadamaSul ma\, kir-kirnigi Swerdulago, nuDedego ba[un batila eb. be;un hangi ;unila ebela' haRda Cebe, aSjobgo co ruq fanab zafdal rafgi ZeRabunila. kwanan, heqon ra]arab me{a', ebela' heRda hiqanila - ra;da`an qwaTibe bazuneb, ber qan?iRefan me{a' ;abVul dunyal Sweruleb xu bugi?& - an. an`awgo judiyaw nartaw ja;azogo Zanila. bi?un hiTinaS abunila - bugeb, ebel, hedinab xu, he'ul beTerhanxigi ra;dal Tinalda wugew ra;dal <axa\. ?ibab qoya', ra;da`an baq baKuleb fuDa' raqdade janvula heb xu. ber qan?iRefan safata' ;abVul dunyalgi Swerula he', ra;ad rafalda bugeb co raFdal \orinibgi xwerdon, saluda Tad gebega]diRegi gebega]dula. RobalaRde farpalabi riXarab co xinari bugeb, helda Tohib heb xoda ;oleb mesedil piligi, helda baleb farcul xolor]ogi bugeb, - an. - felin hanDe, piDa, Swakangi ratilin, - an abunila ebela' wasaRda. weganila, piDanila anpawgo nartaw. he' Gow was coGroniSa qwaTiwe waxanila, reTine reTelgi punila heSiye, rejine xugi punila, baRe yaraGgi punila, qwarifarab ?inab Dogi pun, ra;da]e nu[gi biFiRabun, anila walahiRawun. ebelalda hiTinaw nartaS dob xol {abar bicunago, kinabgo Do heSda rafun bujanila. hanDe wi'anila hew, pabanila, ?wanila ra;dal rafalde. rafalda co gwend bu]anila heS, heniwe `uhun, ber qan?izogo, sordogi borzanila. rohalil ]a\;igi banila, ra;da`an qwaTibe baq baKuleb bujanila, baqalda {adubgo cun, ra;ad rafalde xugi janvanila. ber qan?iRefan me{a' ;abVul duniyalgi Swerun, raFdal \orinibgi xwerdon, ra;dal rafalda saluda Tad gebega]diRe `uhanila heb. tir?un Tadegi wa]un, boroF fadin Demanila was he'ul gorboda, ;abVul ]a\ilab Robalda tunkuledu], e{ede janvanila xu, ;abVul fodob reZun, Zeferab rap SorodiRabunila, kingo biXazila wasaS Kurab gabur. - berhana mun didaSa, hanDe dun dur;ana, dida piligi ;e, zolo]Dogi bay, Tad mungogi reja, - yan abunila xoCa. GoTodaSa bosun piligi ;unila helda heS, zolo]Dogi banila, Tad Diwgogi rejanila. - duCa ?ib ma'ileb hanDe, diCa ?ib hileb& - yan hiqanila xoCa wasaSda. - waxe dun dir inSul ulkayalde, - yan abunila wasaS. borDuneb Doya'ul fadab ri'in baxanila xoCa. ri'anila hel, ri'anila, TerFun baqgi anila, ruJanila, beV;anila, la\Zeferab sordo;anila. hebsafata' na]egi gwanGun anila Rob-rap. abgo ?ib, falamat abun, Cewe walahanila was, VanbiTarab, balahani, ber Swakaleb awla] bugila, bapu` kunzuleb co Do bugila, Dibgo baquCa fadin hel kan;i biXaleb bugila. ?wanila hel helde Tade bugila mesedil \uli. - bosili? diCa hab, bosilari?& - an hiqanila wasaS xoda. - bosanigi, rejeq;iRe wugo mun, bosizonigi raj bu\iRe bugo dur, an abunila xoCa. bosizonigi, rejeq;uleb, bosanigi raj bu\uleb heb bosungo 'ijin abun, ToGroda \uligi qaRabun, wi'anila hew. ?wanila co /aharalde. /ahar Swerun galan bugila, kawabi qan rugila, Daniwe `uhine dunyalalda baj gurila. /ahara'ul rafalda co iC batun, heniw re?Tanila was. xoCa heSda abunila - duCa hanDe dun {arda kwanaRe biXay. qwarifarab me{a', harap habe duCa, anpgo mefer begun dobe{un bugonigi, ber qan?iRefan, dun duda Cebe ZeRe bugo, - yan. biXanila heS xu. Gorp Tenkgi Tamun, qadanib piligi ;un, Tad burtinagi ban, ToGrodaSa ba]un, mesedil \uligi kisinib ;un, piDanila hew, femerab me{a' piDizew xi fadin. qad fadin, sordo gwanGun biFidal, dob /ahara'ul {alq vaq \inqanila, <axa\aSu]e janvanila, hab ?ib falamat abun. heRdaSagi vaq Diwgo <axa\gi \inqanila. heS Swerun ]arawul;i Tamunila, rohinefan piDizila. roharab me{a', nusgo xi wiTanila, reja-rorxun, /ahar tun qwaTire. Degi worzizogo watanila heRda hew was. Tunka-fusun wa]inawunila, <axa\aSu]e waxanila. - mun ?iw, dur rosu-rap, kiSa ?waraw, kinaw xi mun& - an hiqanila <axa\aS. - didagocin ;alaro dun kiSayali, hadingo zalfade dunyal Swerulew xi wugo dun, an abunila wasaS. - hab arab sordoya' dunyal hadadin gwanGiya'e fila ?ibali ;ali? duda, mun qwaTiwgi wujanin& - ilan hiqanila <axa\aS. - he'ul falamat hab bugo, - yan abun, kisiniSa ba]un, mesedil \uli punila heS <axa\aSu]e. fadamaS bicun baDarulareb, dunyal biDaraldaSa kidago fadamaSul Kezeb faSiyab ropi Kanila <axa\aSul dob \uli TaSa bortarab ru\zago;iya'u]. - kiSa balahungi, hab \uli TaSa bortarab ru\zago;i ?weRabe duCa di]e, guroni, diCa dur beTer qoTun re{ila, - yan abunila <axa\aS. Dindiye hereSi;ilaredu], ebela'ul raF \aram habun, hediRegi hawunila <axa\aS hew. fodobe beTergi quliRabun, wi'anila was. /ahar tun qwaTiwe ?warab me{a', co \aSiyab harap habunila heS. kiSa bazarabali ;azogo, Cebe Zanila ]a\ab xu. - dur <a/man;i ?ib, qwara;i ?ib& - an hiqanila xoCa wasaSda. heSgi bicanila <axa\aSulgun `uha-ba]arab Do. - rasgi qwari;uge mun, heldaSa bihayab ni`eye ?ib bujuneb. Gob dun Danib xwerdarab \or ;ali? duda& ra;dal <axa\aSul ;abgo yas yigo, ?ibab qoya' qa;ude baq ba[arab fuDa', maKal;un ra]un raxun, rafalda Didergo maKaRul Tomalgi TaSa ra]un, Gob \orinir xwerdola Gol. bi?un hiTinaldaSa bortarab \uli bugo Gob ni`eda batarab \uli. \or Swerun rugel ]ar]azu` wa{xun wuja mun, Danire dol `uharab me{a', juTun bosun, ;orob ;e duCa bi?un hiTina'ul Tom. 'edon rafaldegi yazun, he' duda harila Tom na]e peyan. kifan haranigi, duCa heb poge, mun he'u] feneKuge. cingi duCa aburab habizogo, duda {aduy yi'inzogo, he'ul xara bujine hezo, - yan abunila xoCa. rejanila was, cin janvara' xoCa \ori]e ?weRawunila. ]ar]aRda horpow wa{xanila hew. qa;ul fuDalda SurSuriyalda bazun, \oril rafalda ;abgo miKi re?Tanila. TaSa maKaRul Tomalgi ra]un, nur fadal musudul `uhun, ruqun hel \orinire anila. janvun wa]un, ;orob qaRabunila wasaS bi?un hiTina'ul Tom. 'edon rafaldegi yazun, hiTinay yas hardanila heSda Tom na]e peyan. kifan haranigi, feneKizila hew, balahizila. Dide-Dider Tomalgi reTun, yorDun anila jiyaygo judiyay yaC. heRda {aduy ak\danila hiTinay - nuDedaSa yaTa;uley yigo, dun hanDe haniy {uTuley yigo. Dir qayi ;urab GamaSfagi nuDeCa hanibe ?weRabe, - yan. ;abVul xu janviRefan na]ruSungi razun, \oril rafalda Rar fanaSeb marDana'ul GamaSgi ;un, yorDun ]a\ilab Rodoye TerFun anila jiyaygo yaC. diCa reTel reTinefan, dowe{un wuSayan abunila yasa' wasaSda. haban abiRe ;alareb, gwanGarab co tama/ayab reTelgi reTun, Zanila hey heSda Ceye. na]a yasgi ;un, rejanila was xoda. - kiye duCa dun yaxuney yigey& - an hiqanila yasa'. - hab ni`eda Cebe bugeb /ahar biFuli? duda, hab /ahara'ul <axa\aSe peRe yaxuney yigo diCa mun, - an abunila haS. - heSiye pezogo, duCago kin yaxunarey dun, - an abunila yasa'gi. wasaS Dindirgogi <axa\aSulgi `uha-ba]arab qiSa bicanila. he'ul bicunago, hel /ahara'ul rafalde ?wanila. henibe xugi biXan, yaxun yasgun, <axa\aSu]e anila hew. yasalda ber zwarabgo, Rar-RarfanaSeb funila <axa\aSul jiyabgo ber, megeD TurTudanila, cabi cocaRda pabunila, ?ibgo rafi na]e Tamizogo, yas yaxine qaSd habunila heS. - mun fadaw [eraSe dun yazunaro, qogo son baraw folo]an;un wa]a mun, hebme{a' yazina dun duye, - yan abunila yasa'. - arab fumru diCa kin na]buSinabuleb& - abunila <axa\aS. - /ahara'ul rafalda jiqoyalda anvgo naT Gwari;uda bugeb gwend bu]iRabe duCa. heb gwend raVadal bafaral faxiyaRul raFdal veRabun, helda Daniw xwerdani, qogo son baraw folo]anxi;un wa]ina mun, - an abunila yasa'. - Dir ulkayaldago ratilaro heb gwend raFdal veRabiRefan femeral bafaral faxi, - yan abunila <axa\aS. - ma hab, - an abun, yasa', kisiniSa ba]un, co hiTinab kwerbaV punila <axa\aSu]e. - habgi bosun, co xi wiTe duCa hab ni`eda Cebe bugeb mafarde. Tohiwe wa[arab me{a', heb Fwafeyan abe duCa heSda, hab mu]go velebin bafaral faxiyaRul. Tolgo /ahar gwend bu]iRe Tamunila <axa\aS. co xi, kwerbaVgi pun, mafarde wiTanila. Tohiwe wa[arab me{a', Fwafanila heS kwerbaV - roFaRdaSa, mufruRdaSa - aRargo baTi-baTiyab bajaldaSa, ferfedulago, janvanila bafaral faxi /ahara'ul rafalde. reZanila yasa' hel, vunila gwend. cingi \inqanila <axa\, jwezila Daniwe `uhine. - raxe hanire co bi?un [eral roS-'adi, - yan abunila yasa'. waxun wazanila nusgo son baraw fadaw, qularaw, beraRda kan;i biFularew co xigi e\edinaygo ZuDugi. ruqiRarunila yasa' hel gwandinir qogo son baraw folo]anxi;un [eraw wa]anila, anvila ?ugo son baray yas-fadan;un [eraygi ya]anila. Tojaw dowe-Gowego balahizogo, janvun wiXan tanila <axa\ gwandiniwe - TuFi fadin, Tinaldegi un, habsafatgi wugila heniw. 'ij bujayan dob /ahara'ul ahluyaldagi abun, wa[un xodegi, na]a yasgi rejinayun, TuriRabunila wasaS ]a\ab xu. ?wanila co /aharalde. baRaralde wi'anila hew, qwarifarab-tarab Do bosiRe. watanila Dindirgo judiyaw waC, [o[orab, maGpa{arab reTelgi reTun, badiSa pergi un, beTerba]iya'e xed bixulew wugila. ro{anila, qoxaranila cocaRda hel, bicanila cocaRda Dide-Dider `uha-ba]arab i/. reTine reTel bosanila heS waCaSe, rejine xu punila, baRe yaraG bujinabunila, cada] waxanila. co RamanaldaSan, unago, ?wanila hel co rosu`e. anila hel baRaralde - watanila horpo]ew waCgi, dunyalalda darmangi qosun, qasabxiyaSda Cewe ]aRa];un Zun, han bixulew watanila heSda hew. bosanila heSiyegi qwarifan ?inab Do. cada] hewgi waxun, wi'anila hanDe ;abawgo waC, cada] yasgi yigila heRda. zor biTun, inSul ulkayalde balahun razunel rugila hel. judiyal waCaRul hanDe Da\da Kanila hiTinaSde{un. «ni` dunyalaldago kin rujunel, inSuda kin riFulel, ruXabaRda kin riFulel, ya ni`go [weRe Kun rugo roqore ?weRefan, ya;uni haw TafinawiRe Kun wugo ni`eCa», - yan gargadanila hel. horpo]ew waCaS abunila - ni`eda Cebe ;abqogo naT Gwari;uda bugeb, Danib 'imgi baqwarab co gwend bugo, helda Tade ?olago, ni`eCa waCaSda abun 'ij, raza xuyal TamiReyan. Tamun unago, horpowegi KeRawun, wiTun gwendalde Tade waxina ni`eCa hew, xugi Diwgogi heniwe Daniwe re{un ina, - yan. jiyawgo waC helda reqanila. Gwendalde Tade ?olago, heSda waCaR abunila - raza xuyal TamiRin, - ilan. we;an]ulago, heS abunila - ber qan?iRefan me{a' ;abVul dunyal Sweruleb dir xugun nuDer xuyal kin rekerulel& - an. jwarizin, dur xol bekerifagi biFileb batila niDedayan abun, heR ;abaSgo xuyal Tamunila. horpowegi KeRawun, biTun gwendalde Tade waxanila heR hew. Tade ?warab me{a', zwarab maf fadin ]a\ab xugi Zanila, defenaSa Daniwe re{un wasgi anila. hanDe heSul xu KweRe rortanila judiyal waCal kwer behulago, berRupa TerFun anila xu. yaxun yasgun, ri'anila hanDe hel. ?wanila inSul /aharalde. sida Daniy yasgi Tamun, Tad ]aravul;igi tun, ri'anila hel inSu]e Tade. co herSida Tad anvgo reqeRabunila, anvgoyalda Tad nusgo ;unila, duda mapi` biFarab xugi duniyalaldago hezeb Do bujun bugin, Robalda Gorp, rapalda Tad, niD ?wezeb, niDeCa ]ir?izeb bajgi {uTizin, ya heb xu biFaraw, ya ;alew, ya rafaraw ?iwnigi insan niDeda watizin abun reqeRabunila. xugo jwarizin diye, nuDer hiTinaw waC kiwe arawan hiqanila inSuCa. heR abunila - ungeyan a\dolel niDgi tun, co kwe/ab, \inqarab nu[a' ana Fow, Toja' wiFizo niDeda, [warawgi ;alaro, wa]arawgi ;alaro, - yan. emen vaq <a/man;anila, /aharaldago ruq riJun, mafu ;unila, ulkaya'go Zefer banila. hanDe jiyawgo waCaS doy yas mujur hayiRe Tade FwadiRayunila co qorolay, diye yazayan coyaS, diye yazayan cogiyaS. Goy yasa' ;aRabunila, xadilgi hanalgi baRar habulel xafaRe dun yazunaroyan. Dun yaxunew xi didago ;ala, nuDgo Vodor rujayan. balahun yijanila hey co qoya' siwul gorduniSan, jiyabgo bergi helde{un buSinabun, ]a\ab xu bugila awla]alda Den-Deduleb. he' Golde kwer Fwafanila - gorda Gorpe bazanila xu. dur beTerhanxi kiw wugewan hiqanila he'. - gwandiniwe re{un wugeb;i ;alari? duda, - yan abunila xoCa. - hew Tade wa]iRe sababgo bujunari?an hiqanila he'. - coyab beTeralda jizgi Gun, ;abqogo naT {ala;uda bugeb kwar re{e duCa dir gorbode, - yan abunila xoCa, - jiziCa dir gabur Kuni, wa]ila diCa Gow Tade. yasalda aSjob kwar batizila, rapanzwan Dindirgo Galalgi qoTun, puranila he' ;abqogo naT {ala;uda bugeb kwar. coyab beTeralda jizgi ban, anila Gob xode re{un. {a<un Kunila jiziCa xol gabur. Turanila ]a\ab xu heniSa, ?wanila gwend bugeb bajalde Tade. behanila Danibe kwar, Kunila wasaS Gob, turjanila he', wa]un wazanila Tade was. Tirigo xoda rejanila Gow, borDarab \inZ fadin, ?wanila hel /aharalde. waCaRda hew wazunew wiFanila, coyaw baqbaKude Turanila, coyaw baqTerFude `utanila, habsafatgi unelgo-unel rugila. \aSil, <axa\ wo{anila, {alq bertade Dubanila, wasaS yas yaxanila. helda dir marhagi `ufarab{a!
- Кетуги цӏиркъги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
КЕТУГИ ЦІИРКЪГИ Рукъалълъул цогидал хӀайваналгун цадахъ азбаралдасса къватӀибеги кӀанцӀун, лълъилалиго цо Кету букӀанила добе бортун, гьанибе бортун, рохьил талаялда басандилеб. Гьеб заманалда рохьоссан унеб букӀараб Цӏиркъалда бихьанила гьеб Кету. ЦӀакъ гӀажаиблъи гьабунила ЦӀиркъалълъ, Катихъги балагьун, чӀчӏезеги чӀчӏун, гьелда гьикъанила: - ВахІ, бацако, балагьараб меххалълъ, мунги нижерго туххумалълъул бугилан ккола, гьедигӀанго гьитӀинаб щайхха мун бугеб, лага-черххго кӀодолъун гьечӀогури дур? Жинда гӀемер гӀакъуба-къварилъи бихьараб ххвелги гьабун, Катицца абунила: - Унго дуцца щибдай гьабилаан, инсанассда асскӀоб гӀумру гьабизе нижее бугеб къварилъи, захІмалъи лъани? - ян. - Мун гьедигӀанго къварид гьабулев чи щив? Вихьизавея цо дида гьев, мун къварид гьавулев чи, дицца гьессул цӀцӏоко бахъила, - ян абунила ЦӀиркъалълъ. Гьенив гӀагардаго жиндирго хур бекьулев вукӀарав цо чияссда асскӀобеги билълъун, гьав чи вугилан вихьизавунила Катицца. - Ле, чи, гьадигӀан къварид щай дуцца гьаб дир бацако гьабулеб? Гьалълъ дуе гьабураб заралго щиб бугеб, лага-черххго кӀодолъулеб гьечӀин гьалълъул дур зулму-хӀалалълъ? ГьабсагӀаталда дицца дур цӀцӏоко бахъила, дуцца гьалълъие гьабураб зулму-хӀалалълъе гӀоло. ХӀадурлъе дурго дунгун вагъизе, - ян абунила ЦӀиркъалълъ хур бекьулев вукӀарассда. Гьев чияссда бичӏчӀанила тӀаде бачӏараб балагь, гьессги цо хӀила ургъанила. Гьесс абунила: - Вагъизеяли дун хӀадур вугоан, диццани дирго кӏвен рокъоб тун букӀанахха. Векерун рокъовеги ун, дун гьебги босун вачӀинин, цинги рагъила нилӏ, - ан. - ЛълъикӀ буго, а, дун духъ балагьун чӀчӏела, - ян абунила ЦӀиркъалълъ. - Нагагь дуцца гуккулев ватани, щиб лълъикӀ, чӀалгӀаде рокъове дунги векеризавун, мун, дун вачӀинегӀан чӀчӏечӏого, цо рахъалълъа гӀебеде инеги бегьула. РачӀа, дун рокъосса дирго кӏвен босун вачӀинегӀан, дицца мун гьаб гъотӀода бухьун тезин. Цинги, дун вачӀаравго, нилӏ кӀиялго рагъила, - ян абуна чиясс. ЛълъикӀ бугилан, разилъанила ЦӀиркъ. Биццатаб кварицца гьесс щула гьабун цо кӀудияб гъотӀода Цӏиркъги бухьанила. АсскӀобго бугеб рохьосса лълъикӀаб тӀилги къотӀун вачӀун, гьале доб дир кӏвениланги абун, ЦӀиркъ буххизе лӏугьанила гьев. Зобалазде рагӀулел гьаркьал гьарун, ахІдолеб, чӀичӀилеб букӀанила тату хвараб ЦӀиркъ. ГӀодоб ккезегӀанги буххун, гьебмеххалда бичун биччанила гьесс ЦӀиркъ, цинги абунила: - Гьанже а дуего бокьаралълъубе, цинги дур иш гуреб жоялда гьоркьобе мун лӏугъани, гьаб жакъа ккараб гӀадаб жо дуе кидаго кколеблъиги кӀочонгехха, - ян. ХӀалалълъ тӀадеги бахъун, лӏутун унеб ЦӀиркъалда бихьанила добегӀан цо ссанда чӀчӏун Кету, гьелълъги Катида абунила: - Валлагь, бацако, мун унго-унгояб хӀалчӀахъад букӀун буго: радал-бакъанида гьагъал тӀилал дудаги щолел ратани, гьедигӀанаб мун гӀейгицин тамаша буго, - ян. ketugi virqgi ruqa'ul cogidal \ayvanalgun cada] aRbaraldaSa qwaTibegi janvun, 'ilaligo co ketu bujanila dobe bortun, hanibe bortun, roFil talayalda basandileb. heb Ramanalda roFoSan uneb bujarab virqalda biFanila heb ketu. vaq faDaib;i habunila virqa', kati]gi balahun, ZeRegi Zun, helda hiqanila - wa\, bacako, balaharab me{a', mungi niDergo tu{uma'ul bugilan Kola, hedifango hiTinab ?ay{a mun bugeb, laga-xer{go jodo;un hezoguri dur& Dinda femer faquba-qwari;i biFarab {welgi habun, katiCa abunila - ungo duCa ?ibday habilaan, insanaSda aSjob fumru habiRe niDeye bugeb qwari;i, Ra\ma;i ;ani& - yan. - mun hedifango qwarid habulew xi ?iw& wiFiRaweya co dida hew, mun qwarid hawulew xi, diCa heSul Voko ba]ila, - yan abunila virqa'. heniw fagardago Dindirgo [ur bepulew wujaraw co xiyaSda aSjobegi bi'un, haw xi wugilan wiFiRawunila katiCa. - le, xi, hadifan qwarid ?ay duCa hab dir bacako habuleb& ha' duye haburab Raralgo ?ib bugeb, laga-xer{go jodo;uleb hezin ha'ul dur Rulmu-\ala'& habsafatalda diCa dur Voko ba]ila, duCa ha'iye haburab Rulmu-\ala'e folo. \adur;e durgo dungun waGiRe, - yan abunila virqa' [ur bepulew wujaraSda. hew xiyaSda biZanila Tade bazarab balah, heSgi co \ila urGanila. heS abunila - waGiReyali dun \adur wugoan, diCani dirgo jwen roqob tun bujana{a. wekerun roqowegi un, dun hebgi bosun wazinin, cingi raGila ni`, - an. - 'ij bugo, a, dun du] balahun Zela, - yan abunila virqa'. - nagah duCa guKulew watani, ?ib 'ij, zalfade roqowe dungi wekeriRawun, mun, dun wazinefan Zezogo, co ra]a'a febede inegi behula. raza, dun roqoSa dirgo jwen bosun wazinefan, diCa mun hab GoToda buFun teRin. cingi, dun wazarawgo, ni` jiyalgo raGila, - yan abuna xiyaS. 'ij bugilan, raRi;anila virq. biCatab kwariCa heS ?ula habun co judiyab GoToda virqgi buFanila. aSjobgo bugeb roFoSa 'ijab Tilgi qoTun wazun, hale dob dir jwenilangi abun, virq bu{iRe `uhanila hew. RobalaRde rafulel harpal harun, a\doleb, zizileb bujanila tatu [warab virq. fodob KeRefangi bu{un, hebme{alda bixun biCanila heS virq, cingi abunila - hanDe a duyego bopara'ube, cingi dur i/ gureb Doyalda horpobe mun `uhani, hab Daqa Karab fadab Do duye kidago Koleb;igi joxonge{a, - yan. \ala' Tadegi ba]un, `utun uneb virqalda biFanila dobefan co Sanda Zun ketu, he'gi katida abunila - walah, bacako, mun ungo-ungoyab \alza]ad bujun bugo, radal-baqanida haGal Tilal dudagi ?olel ratani, hedifanab mun feygicin tama/a bugo, - yan.
- Кинал кӏудиял? | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
КИНАЛ КІУДИЯЛ? Цо нухалда Мала Нассрудинида гьудул-гьалмагъзабаз гьикъанила: - Ваццги мунги кинал нужер кӀудиял? - ан. - Гъоркьиссала инссуцца абулеб рагӀун букӀана дидасса вацц цо соналълъ кӀудияв вугилан. Гьелдасса нахъени цо лъагӀел тӀубана. Гьанже, дир хӀисабалда, ниж кӀиялго ращадал рукӀине ккола, - ян абунила Мала Нассрудиницца. kinal judiyal co nu[alda mala naSrudinida hudul-halmaGRabaR hiqanila - waCgi mungi kinal nuDer judiyal& - an. - GorpiSala inSuCa abuleb rafun bujana didaSa waC co sona' judiyaw wugilan. heldaSa na]eni co ;afel Tubana. hanDe, dir \isabalda, niD jiyalgo ra?adal rujine Kola, - yan abunila mala naSrudiniCa.
- Хӏама киназухъе кьолеб | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ХІАМА КИНАЗУХЪЕ КЬОЛЕБ? Mала Нассрудинил букӀанила цо хераб хӀама. Цо къоялълъ къалъуда мадугьал вачӀанила, метер рохьобе цӀуладе бачине хӀама биччаян гьарун. Биччалин абунила Мала Нассрудиницца. Цо carlaт гьоркьоб араб гӀадаб заманалда цоги мадугьалги ячӏанила, метер гьабихъе бачине хӀама биччаян гьарун. Биччалин абун, гьейги йитӀанила Мала Нассрудиницца. МаркӀачӀуда лъабабилев мадугьалги вачӀанила, метер базаралде бачине хӀама биччаян гьарун. Биччалин, радал бачине вачӀаян гьессдаги абунила Мала Нассрудиницца. - Я гъарин Мала Нассрудин, рачӀа-рачӀаразда биччалин абулеб буго дуцца хӀама. Щай гьедин абулеб, щиб гьабизе ракӀалда дуда бугеб? - ан цӀехханила чӀчӏужуялълъ. - Биччалин абун, рогьинегӀан роххизарураб гӀоларебищ гьел мадугьалзабазе? Метер радалго, бачун хӀамагун, рохьове ина дун, гьел бокьараб гьабулел рукӀа абе, - ян абунила Мала Нассрудиницца. \ama kinaRu]e poleb& mala naSrudinil bujanila co [erab \ama. co qoya' qa;uda maduhal wazanila, meter roFobe vulade baxine \ama biXayan harun. biXalin abunila mala naSrudiniCa. co cafat horpob arab fadab Ramanalda cogi maduhalgi yazanila, meter habi]e baxine \ama biXayan harun. biXalin abun, heygi yiTanila mala naSrudiniCa. marjazuda ;ab~abilew maduhalgi wazanila, meter baRaralde baxine \ama biXayan harun. biXalin, radal baxine wazayan heSdagi abunila mala naSrudiniCa. - ya Garin mala naSrudin, raza-razaraRda biXalin abuleb bugo duCa \ama. ?ay hedin abuleb, ?ib habiRe rajalda duda bugeb& - an ve{anila ZuDuya'. - biXalin abun, rohinefan ro{iRarurab folarebi? hel maduhalRabaRe& meter radalgo, baxun \amagun, roFowe ina dun, hel boparab habulel ruja abe, - yan abunila mala naSrudiniCa.
- Ваццги яццги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ВАЦЦГИ ЯЦЦГИ ВукӀанила вукӀинчӏила цо росулӏ бечедав чи. Лъимер-бетӀер гьечӀолъи гурони, цогидаб жоялълъул рахъалълъ гьессие щибго къварилъи букӀинчӏила. Жиндир лъимер гьечӀолъи гьессда кидаго рекӀелӏ къан букӀунаанила. - БоцӀцӏи-рикъзини кьун бугоан Аллагьасс дие, гьанже цо лъимерги кьолебани, цӀакъ лълъикӀ букӀинаан, дун хун ххадуб дир боцӀцӏи кквезе, - ян абулаанила гьесс кидаго чӀчӏужуялда. Цо сордоялълъ, макьуги бачӀунарого, къоялълъ даран-базар гьабун, щвараб гӀарацги ццебе бан, пикрабазда вукӀанила гьев. - ГьадигӀан гӀемер боцӀцӏи-рикъзиго кьечӀого, Аллагьасс дие цо лъимер кьун букӀарабани, гьебго бокьилаан дие, квине, ретӀине жоялълъе гӀамал диццаго гьабилаан, - илан абунила гьесс чӀчӏужуялда. ГьедигӀан ургъел ккун мун тезе бегьиларо, рачӀа дицца дуе цо чӀчӏужугӀаги ячинин, щиб лъалеб, гьелълъниги дуе лъимер гьабизеги бегьулаян абунила чӀчӏужуялълъ гьессда. Дуда гьедин ракӀалде ккелеб лъан букӀарабани, дицца гьеб рагӀи дуда абизего абилароанилан, кӀанцӀун тӀадеги вахъун, росс жиндирго бусада веганила. Гьанже чӀчӏужу лӏугьанила Аллагьассда гьардезе: БетӀергьан Аллагь! Дур ссундуего хӀалкӀолъи буго, гурхӀахха Мун нижеда, бегьулеб батани, цо лъимер нижееги кье, - ян. Гӏемераб меххалълъ гьедин дугӏа-алхӏам гьабулейги йикӀун, гьейги кьижун кканила. Гьеб сордоялълъ чӀчӏужуялда гьадинаб макьу бихьанила: гьей йигила ралъдал рагӀалда гӀодой чӀчӏун. Цо заманалда, кӀалдиб ккун цо кӀудияб гъамассгун, ралъдалӏа къватӀибе баккун бачӀанила кӀудияб ччугӀа. Гьелълъ гьей гӀаданалда абунила: «Дуцца дурго россассда абе Аллагьасс доссие битӀараб сайигъат бугин гьаб, метер ралъдал рагӀалдеги вачӀун, гьаб нахъе босе», — ян. Макьилӏго гьей екеранила гьенисса рокъое, россассда гьеб ччугӀицца абураб жо бицуней йикӀанила, росс вукӀанила гьелълъ бицунеб жо бичӏчӀуларого. Цо заманалда макьидасса ворчӀанила росс, цо тамашаго чӀчӏужуги йихьун, гьесс гьелда гьикъанила: - Дуе ккараб щиб? Мун цо тамашаго йиго гури, - ян. - Диени расги гьечӀо, дуе лӏугьараб щиб, вихха-ххочун ккун вуго гури мун, - ан абунила гьелълъ. - Дуцца тункидал, ворчӀана дун макьидасса, - ян абунила россасс. Гьебмеххалда чӀчӏужуялълъ россассда бицанила жиндаго бихьараб макьу. ЛълъикӀалълъе батагиянги абун, гьел нахъеги реганила, рогьинегӀанги чӀчӏужуялде тӀокӀаб макьу бачӀинчӀила. Рогьараб меххалълъ, чӀчӏужуялълъ абунила россассда: - Вилълъа, гъарин, цо ралъдал рагӀалде ваккизе а, щиб лъалеб, нолӏ дида бихьараб макьу уяблъун ккезеги бегьула гури, - ян. - Мун гӀадаллъунищ йигей, макьилӏ бихьараб щинаб жоялда божизе ккани. Лъимер кьезе бокьани, нилӏее Аллагьасс гьадингоги кьезе бегьула, - ян чӀчӏанила росс. Кинго чӏчӏужу тӏасса йичӏичӏила, аххиралдаги вахъун росс анила гьелда макьилӏ бихьараб ралъдал рагӀалде. Ралъдал рагӀалдеги щун, гьев дове-гьаниве ссвер-ссведулев вукӀанила. Цо заманалдассан балагьанила, цо кӀудияб гъамасс бугила ралъдал карачалаз босун рагӀалде бачӀунеб. Унго, Аллагь, гьаб карачелаз босун бачӀунеб жо щибдаян вукӀанила гьев пикраби гьарулев. Цо заманалдассан гъамасс рагӀалде реххун бачӀанила. Вилълъун асскӀовегун, балагьанила гьев, бугила щула гьабураб, чанго бакӀалдассан кваразги бухьараб кӀудияб гъамасс. - Унго-унгоги нолӏ дир чӀчӏужуялда бихьараб макьу битӀун кколебцин гурищ бугеб? — анги абун, ричӏун кваралгун, гъанссида жаниве вакканила гьев - бугилахха меседил горо гӀадаб кӀиго гьитӀинаб лъимер: цо васги, цо ясги. Гьел лъимал ратараб меххалълъ, гьев кутакалда вохханила. Жиндаго тӀасса бахъун, ххалгӀатги гьезда жемун, кодор гьел лъималги ккун, вилълъанила гьев рокъове. КӀиго гьитӀинаб лъимерги бачун, росс вачӀараб меххалълъ, чӀчӏужуги цӀакъго йохханила. - Бихьулищ дир макьу битӀун ккараб куц, - ан абунила гьелълъ. Лъималаздасса роххун, иргадал кодоре рачунаго, цо заманалдассан гьел гӀодизе лӏугьанила. Гьебмеххалда чӀчӏужуялълъ абунила: - Нилӏее гьал рокьарал гӀоларо, гьал хахизеги ккола. Кьун мухьгун, гьал лъимал хахизаризе цо чӀчӏужугӏадан кквезе ккола нилӏецца, гурони гьал ракъуцца хвезе руго. - Валлагь, битӀараб бугилан россассги абунила. Гӏемер зенго бихьичӏого, гьезда мадугьалихъго ятанила лъимер хварай цо мискинай гӀадан. Гьелълъулгун къотӀи-къайги гьабун, гьел лъимал хахизе гьелълъухъе кьунила. Гьелълъие гӀураб гӀарацги, ретӀел-хьитги цогидабги кьезе тӀадеги босанила. Гьенир лъималги тун, гьанже нилӏ рилълъинин гьел гьенире кисса ккаралали цӀеххезе. Цо пуланаб шагьаралда вукӀун вуго гьединго лъимер-бетӀер гьечӀев цо ххан. Жиндирго чӀчӏужуялълъ лъимер гьабуларого букӀун, гьесс кӀиабилейги чӀчӏужу ячун йиго. Гъоркь йикӀарай чӀчӏужуялълъе гьей махӀниги йокьулей йикӀун гьечӀо. Рес рекъани, гьей тӀагӀинайизе хӀадурай йикӀун йиго. Росс къватӀиве арав меххалълъ, гъоркь йикӀарай чӀчӏужуялълъ тӀаде ячарай квешго юххулей, кьабулей йикӀун йиго, гьейги, щибго россассдаги бицинчӀого, гӀенеккун чӀчӏолей йикӀанила. Цо заманалдассан гьей, тӀаде ячарай чӀчӏужу лъимер гьабизе унтун лӏугьун йиго, россги рокъов вукӀун гьечӀо. ГьебсагӀаталда гъоркь йикӀарай чӀчӏужу йортун йиго мадугьалихъ йикӀарай цо рекъай къоролалълъухъе, гьелдаги абунила: - Гьагъаб хъахӀбацца лъимер гьабизехъин буго. Нагагь вас гьавуни, гьев нижер бугеб-гьечӀеб боцӀцӏул бетӀергьанлъунги вахъуна, гьединго россасс дун йиччан, гъоб лъимадул эбел хьихьун тезегицин бегьула. Дуцца абунагӀан гӀарац-месед кьела дицца дуе, гьагъаб лъимер гьабигун, тӀагӀинабулеб куц къваригӀун буго, ян. - Дуда гьелълъул ургъел ккоге, гьеб дие цӀакъ бигьаяб жо, - ян абунила рекъай къоролалълъ. Рекъай къоролайги гьейги рилълъанила рокъоре. - Гьалехха дуе кумекалълъе чӏарахъан ячун ячӀана дун, - ан абунила гъоркь йикӀарай чӀчӏужуялълъ лъимер гьабизе егарай чӀчӏужуялда. Рекъай къоролай лълъикӀалълъе ячӀун гьечӀейлъи лъан, гьей йихьизего бокьун букӀинчӀила гьей пакъиралълъе, кинниги, чара къосиналълъ, разилъанила. Цо заманалдассан гьелълъ меседил гарал гӀадал васги ясги гьарунила. ГьебсагӀат чӀарахъаналълъ цо кӀудияб гъанссида жанир гьелги лъунила, лъималазул эбелалда гъоркье хвараб борохьги рехханила. Гьеб кинабго гьелда бихьанила, щибгоги жо абичӀила. Гьеб гъамассги, ахӀун цо-кӀиго бихьинчигун, рокъосса къватӀибе босун анила. Гьеле гьей рекъай къоролалълъ ралъдалӏе реххизарурал лъимал руго дов чияссда ралъдал рагӀалда ратаралги. Гьанже вачӀанила росс рокъове. Гьикъанила гьесс: - ЧӀчӏужу унтун тун йикӀана, васищ гьелълъ гьавурав, ясищ? - ан. - Валлагь, нижер кӀудияв, кигӀан дудасса нечаниги, баххчун щиб гьабилеб, дур гьагъай чӀчӏужуялълъ хвараб борохь гьабуна, - ян абунила хханассда рекъай къоролалълъ. Хханассул кутакалда ццин бахъанила, гьеб къоялълъго рокъосса къватӀие гъунила гъол лъималазул эбел. Дир къисмат гьадинаб букӀун батилиланги абун, гьей пакъирги йилълъанила гьенисса нахъе. ГӀодилаго, чӏвадилаго уней-уней йикӀанила гьей мугӀрул тун, щобал тун. Бакъги тӀерхьанила, дунялги бецІцӏлъизе лӏугьанила, ссвакан татуги хун йикӀун, гьей ясалълъ хӀукму гьабунила цо ссанагӀатаб гӀадинаб бакӀалда сордо базе. Авлахъалда цо гъветӀги батун, яхъун гьеб гъотӀодегун, гӀодой чӀчӏанила гьей. РогьинегӀан гьелда макьуги щвечIила, ракӀалдасса лъималги инчӀила. ХъахІлъи реххарабго, гъотӀодасса гӀодоеги рещтӀун, нахъеги йилълъанила. ЦӀакъ якъунги йикӀанила гьей. Цо заманалдассан гьей щванила, кваназе гӀиги биччан, гӀияда ццеве чӀчӏун вугев вехьассда асскӀое. Хъахӏаб мегежалълъул херав чи вугоанила гьев. Йилълъине рухІги тӀагӀунеб букӀун, гьелълъ хӀукму гьабунила вехьассда дагьаб квен гьаризе. Вехьассда асскӀое щвейгун, гьелълъ абунила: - КӀудияв чи, цӀакъ якъунги йиго, квине жогӀаги гьечӀебищ духъ? - ан. Вехьасс, къвачӀиниссаги бахъун, ясалълъе квине квен кьунила, ххадуб гьелдаги гьикъанила: - Мун кисса, гьаниб дуцца балагьулеб щиб? - ан. Ясалълъ жиндир ккараб щинаб жо бицанила вехьассда. Вехь гьелда цІакъ гурхӀанила, жиндирго рокъоеги ячанила. Рокъор гьессул чӀчӏужуги кӀиго лъимерги рукӀанила: цояв васги, цояй ясги. Вехьасс хъизамалълъаги бицанила гьелълъ жиндаго бицараб ххабар. Вехьассги чӀчӏужуялълъги гьей яс жидерго яслъун гьаюнила. ЛълъикӀалан мехх банила ясалълъ вехьассул бакӀалда, гьелълъие гьениб камураб жоги букӀинчӀила. Кин бугониги гьей цӀакъ пашман йикӀанила, жиндирго кӀиябго лъимер ракӀалдасса араб мехх букӀунароанила гьелълъул. Щибаб сордойил гӀадин, кьижараб меххалълъ, макьилӏ рихьулаанила гьелда жиндирго васги ясги. Радал яхъараб меххалълъ, гӀемерай гӀодулаанила гьей... Дол лъимал рукӀанила рахь рекӀарал кьагӀи гӀадин, бокьараб кун, бокьараб ретӀун, кӀудиял гӀун рачӀунел. Ххассго вас цӏакъ рухІ бугев чи лӏугьунев вукӀанила. Цо къоялълъ къотӏнор расандилаго, гьессухъа цо вас гӀоданила, гьебмеххалда досс гьессда гьадин рогьо банила: - Вилълъа ццевесса, къватӀулӏа жо, дунгун вагъичӏого, мун дурго эбел-эмен ралагьизе щай унарев, гьедигIан цӀакъав чи? - ян. Васассда гьеб рагӀи цӀакъ рекӀеда унтанила, пашмангоги рокъове вилълъанила. Вас пашманго вихьун, эбелалълъ гьикъанила: - Дуе щиб ккараб, дир вас, мун жакъа цӀакъ пашман вуго гури, - ян. Васасс гьелда бицанила жинда мадугьалассул васасс бараб рогьо, - Гьеб жо кӀудияб гьересси буго, воре, мун гьелда божуге, - ян абунила гъолълъ гьессда. Васги дагьав гӀодове виччан лӏугьанила. Гьеб сордоялълъни къасси васассдаги ясалдаги - кӀияздаго макьилӏ бихьанила жидер эбел йигеб вехьассул рукъ, жидерго эбел, эбелалълъ макьилӏ гьезда бицанила ккараб щинаб жоги. Радал ворчӀаравго, ваццасс яццалда бицанила жинда бихьараб макьу, яццалълъги бицанила гьебго макьу жиндаги бихьанилан. Гьебмеххалда васассда бичІчӀанила жинда лъималаз бараб рогьо гьересси гуреблъи, инссуда асскӀовеги ун, гьессдаги яццалдаги бицанила жиндагоги нолӏ бихьараб макьу. Гьебмеххалда инссуцца гьессда абунила: - Валлагь, дир вас, нужер эбел-эмен щалали дида лъаларо, дидани нуж ралъдал рагӀалда кӀудияб гъанссида жанир ратана, - ян. Гьеб рагӏарабго, васассги ясалълъги бетӀералдасса рас бетӀанила. - Нижер эбел чӀаго йиго, дой вехьассул доя йиго, нижилан абуни гьанир щибго лъаларого, квана-гьекъон, кепалда руго! - ян ахІданила гьел. Россассулги чӀчӏужуялълъулги рес къотӀанила. Берцинаб мацІцӏ бицун, лъималазул ракӀ батизабизе лӏугьанила гьел, гьелдассани щибго жо ккечӀила. Васасс абунила: - Валлагь, цо лахӏзаталълъги чӀчӏеларо дун гьанив, дирго эбел ялагьичӀого,- ян. Жиндирго яццги танила гьесс гьел чагӀазда асскӀой, живги вахъанила къватӀиве, я дун хвела, ялъуни эбел ялагьилилан, щулияб къотӀигун. Макьилӏ эбелалълъ малълъун букӀанила васассда жий йигеб бакӀалде вачӀине кколеб куцги нухги. Гьединлъидал вас, кивниги чӀчӏечӀого, кваначӀого, гьекъечӀого, эбел ятизеги йихьизеги бугеб гӀишкъуялълъ ссвак лъачӀого, уневго унев вукӀанила. Цо мугӀрул щобал ругеб бакӀалдассан къотӀун унаго, гьессда данде бачӀанила анкьго бетӀер бугеб аздагьо. Гьев вас дагьав хӀинкъарав гӀадин лӏугьанила, щайин абуни гьессда киданиги аздагьо бихьун букӀинчӀила. Гьеб гуребги, рокъосса къватӀиве вахъунаго, гьесс щибниги ярагъ цадахъ босунги букӀинчӏо. Щибдай гьанже гьабилаян вукӀаго, гьессда хьолбохъ цо кӀудияб гамачӏ батанила. Босун гьеб гамачӏ речӀчӀанила васасс аздагьоялълъул ботӏролӏ. Аздагьо бугелълъуб гӀодоб кканила. Гьелълъ васассде ахӀанила: - Мун бихьинчи ватани, цоги речӀчӀе дида, - ян. Васасс абула: - Эбелалълъ дун цо гьавун вуго, цо речӏчӏараб дуеги гӀела, - ян. Аздагьо бугелълъуб хванила, васги жиндирго нухалълъ анила. Гьедин унаго, вас щванила доб сордоялълъ жиндир эбелалълъ сордо бараб гъотӀода гъоркье. Ссваканги вукӀун, вас цо дагьаб заманалълъ гьенив гӀебеде чІванила. Цо заманалдасса гьессда рагӀанила мугӀрул риххулеб гӀадаб гӀассияб гьаракь, балагьанила гьав, бачӀунеб бихьанила жинцца чІваралдассаги кӀудияб аздагьо. КӀалдиссан цӏа бугила гьелълъул бурулеб, ццунтур гӀадин багӀарлъун берал ругила, хӀур бахъун бачӀинеб бугила. Гьеб букӀанила доб чІвараб аздагьоялълъул кӀудияб бацц. Жиндир бацц чӏвараблъиги лъан, тушман валагьизеян бахъун букӀанила гьеб къватӀибе. Гьев вас вихьараб меххалълъ, аздагьоялълъ ахӀанила: - Дир бацц чІварав тушман мун вукӀине ккола, гьанже бихьила гури дицца дуе гьабулеб жо, - ян. Ххурхханила аздагьоги васги цоцалълъ. Ккун боххгун, бетӏералдассан ссверизабун, гӀодоб кьабунила васасс аздагьо. - Дир рухІ бахъарасс дир ххазинаги босе, - ян гьаракьги гьабун, хӀалалълъ хъурщун, аздагьо анила жиндирго рукӏнибе. Ххадув васги вилълъанила. Балагьанила, бугила гъваридаб цо нохъо, гӀодоре рещтӀунеб цо малиги бугила. Вилълъанила вас молодасса гӀодовеги рещтӀун, ругила цо чӀухӀарал кӀалгӀаби, щивниги чияссул сасги гьечIила. Довеххун валагьанила, гьанивеххун валагьанила, цо нуцӏцӏа бихьанила. Рагьун нуцӀцӏагун, вакканила жаниве, йигилахха цо берцинай яс. Йихьигун, гьей ясалълъухъ рокьи кканила гьессул. Гьев вихьигун, ясалълъулги кканила рокьи. Аздагьо чІвараблъиги лъачӀого, гьей ясалде кӀудияб ургъел кканила гьессул. Нагагь жал гъолда рихьани, кӀиялго чӏвалин гъолълъан йикӀанила гьей. - Ле, гӀолохъанчи, мун гьаниве кисса ккарав? Гьаб буго аздагьабазул хханассул кӀалгӀа. Мун гьанив ватани, гъолълъ мун чІвала, - ян абунила гьелълъ. - Гьебги гьелълъул баццги - кӀиябго чІван реххараб дицца, Дуда гьелълъул ургъел ккоге, мун дунгун цадахъ йилълъине хӀадурлъе, ян абунила васасс гьелда. Гьесс бицараб жоялда цин божуларогоги йикӀанила гьей, нахъа гьев васассул рагъа-рачариялдасса гьелда бичІчӀанила гьесс бицунеб жо битӀараб букӀин. - Йилълъа дурго ххеххлъи гьабун, дун гӀедегӀун вуго, дир цоги иш буго, - ян абунила гьесс. Гьедин бугони, нилӏецца гьанисса гӀарац-меседгӏаги босун лълъикӀ. Гьаб малгӀуналълъул гьаниб цӀакъ бечедаб ххазина буго, - ян абунила гьелълъ. Ццее ясги ххадув васги рилълъанила кӀалгӀабахъ тира-ссверизе. КӀикъого рукъ цӀураб жавгьар, якъут, гӀарац, месед батанила аздагьоялълъул ххазинадул. Васасс ясалда нахъеги абунила: Дир ххирияй гьудул, дун цӀакъ гӀедегӀун вуго, дир цоги кІвар бугеб иш буго, гьединлъидал гьаб ххазина босизе нилӏ нахъруссун рачӀина, гьабсагӀаталълъ нилӏ нухда рахъине ккола, - ян. Рилълъаххаянги абун, гьел кӀиялго гьенисса къватӏире лӏугьанила, нухдаги рахъанила. ЛълъикӀаланго рилълъараб меххалълъ, гьезда цо басриябго рукъ батанила нухда. ГьебсагӀат васассда ракӀалде щванила жинда бихьараб макьуги, гьеб рукъги жиндир эбел жаний йигеб вехьассул рукъ букӀин лъанила. - Гьале гьаний жаний дир эбел йиго, ан ясалдаги абун, васасс нуцӀцӏида кӀутӀанила. Гьеб заманалда гьессул эбел ретӀел чурулей йикӀанила. НуцӀцӏида кӀутӀулеб рагӀарабго, йортун ун, гьелълъ нуцӏцӏа рагьанила. Жаниве лӏугьаравго, васассда жиндирго эбел лъанила, эбелалда васги лъанила. Гьел гӀодилаго, цоцалълъ ххурхханила. лълъикӀалан меххалълъ рагӀи абизе кӀоларого ххутӏанила. ГьебсагӀат вехьассул чӀчӏужуги лъималги рачӀанила тӀаде. Гьез ххабар-кӀалалде байбихьанила, иргадал эбелалълъги васассги жиде-жидер ккараб, лӏугьараб бицанила. Къасси рокъове вехьги вачӀанила, гьессдаги бицанила ккараб-тараб. Радал гьев вас, вехьассул кинабго хъизан-агьлуги, жиндирго эбелги, гъой ясги цадахъ рачун, къватӀиве вахъанила аздагьоялълъул ххазина бугеб бакӀалде. Щибниги жо гъоркь течӀого, гьенисса тӀолго ххазинаги босанила гьез, гьаказда, чуязда, хӀамузда лъун, жалгоги рилълъанила гъов васги ясги хьихьун гӀезарурав чияссул бакӀалде ралагьун. Цо чанго къо нухдаги бан, гьел рокъоре щванила. Рукъалълъул агьлуго данде бахъун, кӀудияб роххел гьабунила, ххассго цӀакъ йохханила гъой яс, жиндир эбел ятиялдасса. Эбелги ясги лълъикӀалан меххалълъ цоцалълъ ххурххун, гӀода-чІвадулелги рукӀанила. Васги, ясги, эбелги цоцазда ратиялдасса роххун, гьел лъимал хьихьун рукӀарал чагӀаз кӀудияб бертин, квана-гьекъей гьабунила, гӀадамалги ахӀун. Гьенибго гьев васасce дой, аздагьоялда асскӀой ятарай ясги ячанила, васассул яццги вехьассул васасcе кьунила, вехьассул ясги, цо лълъикӀав васги ватун, гьессие кьунила. Анкьицца квана-гьекъей, ссухІмат-кеп букӀанила. Гьанже, ахӀа-тарал чагӀи рокъо-рокъоре араб меххалълъ, гьел лъимал хьихьун вукӀарав чиясс, жиндир бугеб боцӀцӏул цӏцӏикІкӀарассебги кьун, гьев васги ясги жиндирго лъималлъун гьарунила. Гьезул эбелги, жиндирго яццлъун гьаюн, боцӀцӏи-рикъзиги йикӀине лълъикӀаб рукъги кьун танила. waCgi yaCgi wujanila wujinzila co rosu` bexedaw xi. ;imer-beTer hezo;i guroni, cogidab Doya'ul ra]a' heSiye ?ibgo qwari;i bujinzila. Dindir ;imer hezo;i heSda kidago reje` qan bujunaanila. - boVi-riqRini pun bugoan alahaS diye, hanDe co ;imergi polebani, vaq 'ij bujinaan, dun [un {adub dir boVi KweRe, - yan abulaanila heS kidago ZuDuyalda. co sordoya', mapugi bazunarogo, qoya' daran-baRar habun, ?warab faracgi Cebe ban, <ikrabaRda wujanila hew. - hadifan femer boVi-riqRigo pezogo, alahaS diye co ;imer pun bujarabani, hebgo bopilaan diye, kwine, reTine Doya'e famal diCago habilaan, - ilan abunila heS ZuDuyalda. hedifan urGel Kun mun teRe behilaro, raza diCa duye co ZuDufagi yaxinin, ?ib ;aleb, he'nigi duye ;imer habiRegi behulayan abunila ZuDuya' heSda. duda hedin rajalde Keleb ;an bujarabani, diCa heb rafi duda abiRego abilaroanilan, janvun Tadegi wa]un, roS Dindirgo busada weganila. hanDe ZuDu `uhanila alahaSda hardeRe beTerhan alah! dur Sunduyego \aljo;i bugo, gur\a{a mun niDeda, behuleb batani, co ;imer niDeyegi pe, - yan. femerab me{a' hedin dufa-al\am habuleygi yijun, heygi piDun Kanila. heb sordoya' ZuDuyalda hadinab mapu biFanila, hey yigila ra;dal rafalda fodoy Zun. co Ramanalda, jaldib Kun co judiyab GamaSgun, ra;da`a qwaTibe baKun bazanila judiyab Xufa. he' hey fadanalda abunila, - «duCa durgo roSaSda abe alahaS doSiye biTarab sayiGat bugin hab, meter ra;dal rafaldegi wazun, hab na]e bose», — yan. mapi`go hey ekeranila heniSa roqoye, roSaSda heb XufiCa aburab Do bicuney yijanila, roS wujanila he' bicuneb Do biZularogo. co Ramanalda mapidaSa worzanila roS, co tama/ago ZuDugi yiFun, heS helda hiqanila - duye Karab ?ib& mun co tama/ago yigo guri, - yan. - diyeni rasgi hezo, duye `uharab ?ib, wi{a-{oxun Kun wugo guri mun, - an abunila he'. - duCa tunkidal, worzana dun mapidaSa, - yan abunila roSaS. hebme{alda ZuDuya' roSaSda bicanila Dindago biFarab mapu. 'ija'e batagiyangi abun, hel na]egi reganila, rohinefangi ZuDuyalde Tojab mapu bazinzila. roharab me{a', ZuDuya' abunila roSaSda - wi'a, Garin, co ra;dal rafalde waKiRe a, ?ib ;aleb, no` dida biFarab mapu uyab;un KeRegi behula guri, - yan. - mun fadal;uni? yigey, mapi` biFarab ?inab Doyalda boDiRe Kani. ;imer peRe bopani, ni`eye alahaS hadingogi peRe behula, - yan Zanila roS. kingo ZuDu TaSa yizizila, a{iraldagi wa]un roS anila helda mapi` biFarab ra;dal rafalde. ra;dal rafaldegi ?un, hew dowe-haniwe Swer-Swedulew wujanila. co RamanaldaSan balahanila, co judiyab GamaS bugila ra;dal karaxalaR bosun rafalde bazuneb. ungo, alah, hab karaxelaR bosun bazuneb Do ?ibdayan wujanila hew <ikrabi harulew. co RamanaldaSan GamaS rafalde re{un bazanila. wi'un aSjowegun, balahanila hew, bugila ?ula haburab, xango bajaldaSan kwaraRgi buFarab judiyab GamaS. - ungo-ungogi no` dir ZuDuyalda biFarab mapu biTun Kolebcin guri? bugeb& — angi abun, rizun kwaralgun, GanSida Daniwe waKanila hew - bugila{a mesedil goro fadab jigo hiTinab ;imer, co wasgi, co yasgi. hel ;imal ratarab me{a', hew kutakalda wo{anila. Dindago TaSa ba]un, {alfatgi heRda Demun, kodor hel ;imalgi Kun, wi'anila hew roqowe. jigo hiTinab ;imergi baxun, roS wazarab me{a', ZuDugi vaqgo yo{anila. - biFuli? dir mapu biTun Karab kuc, - an abunila he'. ;imalaRdaSa ro{un, irgadal kodore raxunago, co RamanaldaSan hel fodiRe `uhanila. hebme{alda ZuDuya' abunila - ni`eye hal roparal folaro, hal [a[iRegi Kola. pun muFgun, hal ;imal [a[iRariRe co ZuDufadan KweRe Kola ni`eCa, guroni hal raquCa [weRe rugo. - walah, biTarab bugilan roSaSgi abunila. femer Rengo biFizogo, heRda maduhali]go yatanila ;imer [waray co miskinay fadan. he'ulgun qoTi-qaygi habun, hel ;imal [a[iRe he'u]e punila. he'iye furab faracgi, reTel-Fitgi cogidabgi peRe Tadegi bosanila. henir ;imalgi tun, hanDe ni` ri'inin hel henire kiSa Karalali ve{eRe. co <ulanab /aharalda wujun wugo hedingo ;imer-beTer hezew co {an. Dindirgo ZuDuya' ;imer habularogo bujun, heS jiabileygi ZuDu yaxun yigo. Gorp yijaray ZuDuya'e hey ma\nigi yopuley yijun hezo. res reqani, hey TafinayiRe \aduray yijun yigo. roS qwaTiwe araw me{a', Gorp yijaray ZuDuya' Tade yaxaray kwe/go yu{uley, pabuley yijun yigo, heygi, ?ibgo roSaSdagi bicinzogo, feneKun Zoley yijanila. co RamanaldaSan hey, Tade yaxaray ZuDu ;imer habiRe untun `uhun yigo, roSgi roqow wujun hezo. hebsafatalda Gorp yijaray ZuDu yortun yigo maduhali] yijaray co reqay qorola'u]e, heldagi abunila - haGab ]a\baCa ;imer habiRe]in bugo. nagah was hawuni, hew niDer bugeb-hezeb boVul beTerhan;ungi wa]una, hedingo roSaS dun yiXan, Gob ;imadul ebel FiFun teRegicin behula. duCa abunafan farac-mesed pela diCa duye, haGab ;imer habigun, Tafinabuleb kuc qwarifun bugo, yan. - duda he'ul urGel Koge, heb diye vaq bihayab Do, - yan abunila reqay qorola'. reqay qorolaygi heygi ri'anila roqore. - hale{a duye kumeka'e zara]an yaxun yazana dun, - an abunila Gorp yijaray ZuDuya' ;imer habiRe egaray ZuDuyalda. reqay qorolay 'ija'e yazun hezey;i ;an, hey yiFiRego bopun bujinzila hey <aqira'e, kinnigi, xara qosina', raRi;anila. co RamanaldaSan he' mesedil garal fadal wasgi yasgi harunila. hebsafat zara]ana' co judiyab GanSida Danir helgi ;unila, ;imalaRul ebelalda Gorpe [warab boroFgi re{anila. heb kinabgo helda biFanila, ?ibgogi Do abizila. heb GamaSgi, a\un co-jigo biFinxigun, roqoSa qwaTibe bosun anila. hele hey reqay qorola' ra;da`e re{iRarural ;imal rugo dow xiyaSda ra;dal rafalda rataralgi. hanDe wazanila roS roqowe. hiqanila heS - ZuDu untun tun yijana, wasi? he' hawuraw, yasi?& - an. - walah, niDer judiyaw, kifan dudaSa nexanigi, ba{xun ?ib habileb, dur haGay ZuDuya' [warab boroF habuna, - yan abunila {anaSda reqay qorola'. {anaSul kutakalda Cin ba]anila, heb qoya'go roqoSa qwaTiye Gunila Gol ;imalaRul ebel. dir qismat hadinab bujun batililangi abun, hey <aqirgi yi'anila heniSa na]e. fodilago, zwadilago uney-uney yijanila hey mufrul tun, ?obal tun. baqgi TerFanila, dunyalgi beV;iRe `uhanila, Swakan tatugi [un yijun, hey yasa' \ukmu habunila co Sanafatab fadinab bajalda sordo baRe. awla]alda co GweTgi batun, ya]un heb GoTodegun, fodoy Zanila hey. rohinefan helda mapugi ?wezila, rajaldaSa ;imalgi inzila. ]a\;i re{arabgo, GoTodaSa fodoyegi re?Tun, na]egi yi'anila. vaq yaqungi yijanila hey. co RamanaldaSan hey ?wanila, kwanaRe figi biXan, fiyada Cewe Zun wugew weFaSda aSjoye. ]a\ab megeDa'ul [eraw xi wugoanila hew. yi'ine ru\gi Tafuneb bujun, he' \ukmu habunila weFaSda dahab kwen hariRe. weFaSda aSjoye ?weygun, he' abunila - judiyaw xi, vaq yaqungi yigo, kwine Dofagi hezebi? du]& - an. weFaS, qwaziniSagi ba]un, yasa'e kwine kwen punila, {adub heldagi hiqanila - mun kiSa, hanib duCa balahuleb ?ib& - an. yasa' Dindir Karab ?inab Do bicanila weFaSda. weF helda vaq gur\anila, Dindirgo roqoyegi yaxanila. roqor heSul ZuDugi jigo ;imergi rujanila, coyaw wasgi, coyay yasgi. weFaS ]iRama'agi bicanila he' Dindago bicarab {abar. weFaSgi ZuDuya'gi hey yas Didergo yas;un hayunila. 'ijalan me{ banila yasa' weFaSul bajalda, he'iye henib kamurab Dogi bujinzila. kin bugonigi hey vaq <a/man yijanila, Dindirgo jiyabgo ;imer rajaldaSa arab me{ bujunaroanila he'ul. ?ibab sordoyil fadin, piDarab me{a', mapi` riFulaanila helda Dindirgo wasgi yasgi. radal ya]arab me{a', femeray fodulaanila hey... dol ;imal rujanila raF rejaral pafi fadin, boparab kun, boparab reTun, judiyal fun razunel. {aSgo was va` ru\ bugew xi `uhunew wujanila. co qoya' qoTnor rasandilago, heSu]a co was fodanila, hebme{alda doS heSda hadin roho banila - wi'a CeweSa, qwaTu`a Do, dungun waGizogo, mun durgo ebel-emen ralahiRe ?ay unarew, hedifan vaqaw xi& - yan. wasaSda heb rafi vaq rejeda untanila, <a/mangogi roqowe wi'anila. was <a/mango wiFun, ebela' hiqanila - duye ?ib Karab, dir was, mun Daqa vaq <a/man wugo guri, - yan. wasaS helda bicanila Dinda maduhalaSul wasaS barab roho, - heb Do judiyab hereSi bugo, wore, mun helda boDuge, - yan abunila Go' heSda. wasgi dahaw fodowe wiXan `uhanila. heb sordoya'ni qaSi wasaSdagi yasaldagi - jiyaRdago mapi` biFanila Dider ebel yigeb weFaSul ruq, Didergo ebel, ebela' mapi` heRda bicanila Karab ?inab Dogi. radal worzarawgo, waCaS yaCalda bicanila Dinda biFarab mapu, yaCa'gi bicanila hebgo mapu Dindagi biFanilan. hebme{alda wasaSda biZanila Dinda ;imalaR barab roho hereSi gureb;i, inSuda aSjowegi un, heSdagi yaCaldagi bicanila Dindagogi no` biFarab mapu. hebme{alda inSuCa heSda abunila - walah, dir was, nuDer ebel-emen ?alali dida ;alaro, didani nuD ra;dal rafalda judiyab GanSida Danir ratana, - yan. heb rafarabgo, wasaSgi yasa'gi beTeraldaSa ras beTanila. - niDer ebel zago yigo, doy weFaSul doya yigo, niDilan abuni hanir ?ibgo ;alarogo, kwana-heqon, ke<alda rugo! - yan a\danila hel. RoSaSulgi ZuDuya'ulgi res qoTanila. bercinab maV bicun, ;imalaRul raj batiRabiRe `uhanila hel, heldaSani ?ibgo Do Kezila. wasaS abunila - walah, co la\Rata'gi Zelaro dun haniw, dirgo ebel yalahizogo,- yan. Dindirgo yaCgi tanila heS hel xafaRda aSjoy, Diwgi wa]anila qwaTiwe, ya dun [wela, ya;uni ebel yalahililan, ?uliyab qoTigun. mapi` ebela' ma'un bujanila wasaSda Diy yigeb bajalde wazine Koleb kucgi nu[gi. hedin;idal was, kiwnigi Zezogo, kwanazogo, heqezogo, ebel yatiRegi yiFiRegi bugeb fi/quya' Swak ;azogo, unewgo unew wujanila. co mufrul ?obal rugeb bajaldaSan qoTun unago, heSda dande bazanila anpgo beTer bugeb aRdaho. hew was dahaw \inqaraw fadin `uhanila, ?ayin abuni heSda kidanigi aRdaho biFun bujinzila. heb gurebgi, roqoSa qwaTiwe wa]unago, heS ?ibnigi yaraG cada] bosungi bujinzo. ?ibday hanDe habilayan wujago, heSda Folbo] co judiyab gamaz batanila. bosun heb gamaz reZanila wasaS aRdahoya'ul boTro`. aRdaho buge'ub fodob Kanila. he' wasaSde a\anila - mun biFinxi watani, cogi reZe dida, - yan. wasaS abula - ebela' dun co hawun wugo, co reZarab duyegi fela, - yan. aRdaho buge'ub [wanila, wasgi Dindirgo nu[a' anila. hedin unago, was ?wanila dob sordoya' Dindir ebela' sordo barab GoToda Gorpe. Swakangi wujun, was co dahab Ramana' heniw febede zwanila. co RamanaldaSa heSda rafanila mufrul ri{uleb fadab faSiyab harap, balahanila haw, bazuneb biFanila DinCa zwaraldaSagi judiyab aRdaho. jaldiSan va bugila he'ul buruleb, Cuntur fadin bafar;un beral rugila, \ur ba]un bazineb bugila. heb bujanila dob zwarab aRdahoya'ul judiyab baC. Dindir baC zwarab;igi ;an, tu/man walahiReyan ba]un bujanila heb qwaTibe. hew was wiFarab me{a', aRdahoya' a\anila - dir baC zwaraw tu/man mun wujine Kola, hanDe biFila guri diCa duye habuleb Do, - yan. {ur{anila aRdahogi wasgi coca'. Kun bo{gun, beTeraldaSan SweriRabun, fodob pabunila wasaS aRdaho. - dir ru\ ba]araS dir {aRinagi bose, - yan harapgi habun, \ala' ]ur?un, aRdaho anila Dindirgo rujnibe. {aduw wasgi wi'anila. balahanila, bugila Gwaridab co no]o, fodore re?Tuneb co maligi bugila. wi'anila was molodaSa fodowegi re?Tun, rugila co zu\aral jalfabi, ?iwnigi xiyaSul sasgi hezila. dowe{un walahanila, haniwe{un walahanila, co nuVa biFanila. rahun nuVagun, waKanila Daniwe, yigila{a co bercinay yas. yiFigun, hey yasa'u] ropi Kanila heSul. hew wiFigun, yasa'ulgi Kanila ropi. aRdaho zwarab;igi ;azogo, hey yasalde judiyab urGel Kanila heSul. nagah Dal Golda riFani, jiyalgo zwalin Go'an yijanila hey. - le, folo]anxi, mun haniwe kiSa Karaw& hab bugo aRdahabaRul {anaSul jalfa. mun haniw watani, Go' mun zwala, - yan abunila he'. - hebgi he'ul baCgi - jiyabgo zwan re{arab diCa, duda he'ul urGel Koge, mun dungun cada] yi'ine \adur;e, yan abunila wasaS helda. heS bicarab Doyalda cin boDularogogi yijanila hey, na]a hew wasaSul raGa-raxariyaldaSa helda biZanila heS bicuneb Do biTarab bujin. - yi'a durgo {e{;i habun, dun fedefun wugo, dir cogi i/ bugo, - yan abunila heS. hedin bugoni, ni`eCa haniSa farac-mesedfagi bosun 'ij. hab malfuna'ul hanib vaq bexedab {aRina bugo, - yan abunila he'. Ceye yasgi {aduw wasgi ri'anila jalfaba] tira-SweriRe. jiqogo ruq vurab Dawhar, yaqut, farac, mesed batanila aRdahoya'ul {aRinadul. wasaS yasalda na]egi abunila, dir {iriyay g'udul, dun vaq fedefun wugo, dir cogi jwar bugeb i/ bugo, hedin;idal hab {aRina bosiRe ni` na]ruSun razina, habsafata' ni` nu[da ra]ine Kola, - yan. ri'a{ayangi abun, hel jiyalgo heniSa qwaTire `uhanila, nu[dagi ra]anila. 'ijalango ri'arab me{a', heRda co basriyabgo ruq batanila nu[da. hebsafat wasaSda rajalde ?wanila Dinda biFarab mapugi, heb ruqgi Dindir ebel Daniy yigeb weFaSul ruq bujin ;anila. - hale haniy Daniy dir ebel yigo, an yasaldagi abun, wasaS nuVida juTanila. heb Ramanalda heSul ebel reTel xuruley yijanila. nuVida juTuleb rafarabgo, yortun un, he' nuVa rahanila. Daniwe `uharawgo, wasaSda Dindirgo ebel ;anila, ebelalda wasgi ;anila. hel fodilago, coca' {ur{anila. 'ijalan me{a' rafi abiRe jolarogo {uTanila. hebsafat weFaSul ZuDugi ;imalgi razanila Tade. heR {abar-jalalde baybiFanila, irgadal ebela'gi wasaSgi Dide-Dider Karab, `uharab bicanila. qaSi roqowe weFgi wazanila, heSdagi bicanila Karab-tarab. radal hew was, weFaSul kinabgo ]iRan-ahlugi, Dindirgo ebelgi, Goy yasgi cada[ raxun, qwaTiwe wa]anila aRdahoya'ul {aRina bugeb bajalde. ?ibnigi Do Gorp tezogo, heniSa Tolgo {aRinagi bosanila heR, hakaRda, xuyaRda, \amuRda ;un, Dalgogi ri'anila Gow wasgi yasgi FiFun feRaruraw xiyaSul bajalde ralahun. co xango qo nu[dagi ban, hel roqore ?wanila. ruqa'ul ahlugo dande ba]un, judiyab ro{el habunila, {aSgo vaq yo{anila Goy yas, Dindir ebel yatiyaldaSa. ebelgi yasgi 'ijalan me{a' coca' {ur{un, foda-zwadulelgi rujanila. wasgi, yasgi, ebelgi cocaRda ratiyaldaSa ro{un, hel ;imal FiFun rujaral xafaR judiyab bertin, kwana-heqey habunila, fadamalgi a\un. henibgo hew wasaSe doy, aRdahoyalda aSjoy yataray yasgi yaxanila, wasaSul yaCgi weFaSul wasaSe punila, weFaSul yasgi, co 'ijaw wasgi watun, heSiye punila. anpiCa kwana-heqey, Su\mat-ke< bujanila. hanDe, a\a-taral xafi roqo-roqore arab me{a', hel ;imal FiFun wujaraw xiyaS, Dindir bugeb boVul ViJaraSebgi pun, hew wasgi yasgi Dindirgo ;imal;un harunila. heRul ebelgi, Dindirgo yaC;un hayun, boVi-riqRigi yijine 'ijab ruqgi pun tanila.
- Церги чакъалги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ЦЕРГИ ЧАКЪАЛГИ Цо нухалълъ щивниги чи гьечӀеб нухдасса гӀебеде Церги Чакъалги рекерун унел рукӀун руго. Чакъалалълъ царада гьикъун буго: - Кинал батӀи-батӀиял гӀелмаби дуцца цӀцӏаларалали бицинарищ, дир ххирияб Цер? - илан. - Дицца бащдаб гурони гӀелму цӀцӏаличӀо. Дуцца чан цӀцӏалараб? - илан гьикъун буго Царацца. - Диццани кӀигогин бащдаб цІцӏалана! — ян Царае жавабги кьун, жибго жиндиего гӀураб къагӀидаялдасса белъанхъун буго Чакъал. - Гьедин батани, мун дидасса цӏцӏодораб бугеб рагӀулахха, нухда мун дидасса ццебе-ццебе букӀине ккола, - ян сихӀираб къагӀидаялда малълъун буго Царацца. Гьел рикӀкӀаде рекерун унел рукӀун руго. Нухда гьезда дандчІван буго цо бакъараб ГъалбацІ. Гьениб Царацца Чакъалалда абун буго: - Гьа, цо кинаб бугониги сихӀруялълъе ургъе ххеххго, гурони ГъалбацӀицца нилӏ кӀиялго чӀвазе руго! — ян. Чакъал Царада гьардезе лӏугьун буго: - Дида кинаб бугониги сихӀру ургъизе кӀолеб гьечӀо. Дудаги ххвассар гьаризе кӀвечӀони, нилӏеда тӀаде гьанже хвалил сагӀат гӀунтӀана! — ян. - Бихьулищ кинаб гӀакълуялълъул бетӀергьан мун бугеб? - ан абун буго Царацца гьелда. - Биччантехха гьанже дунниги ццебе! Гьел рагӀабиги абун, Цер, Чакъалалда ццебеххунги лӏугьун, ГъалбацӀидеххун гьадин кӀалъан буго: - Къуват бугеб ГъалбацІ, Аллагьасс дур гӀумру ххалат гьабеги! Гьарула дуда, нижер дагӀбаялълъе хӀукму къотӀеян! - абун. - Ххеххго бице! - ян ццидахъего кӀалъан буго гьеб, гьел гӀалхул хӀайваназде берги щвезабун, цинги кинабдай гьезул тӀоццебе кун лълъикӀилан ракӀалдеги ккун. - Нижецца ккун буго кӀиго хӀелекоги цо гӀанкӀудул ТӀинчІги. Гьеле гьел сабаблъун нижеда гьоркьоб дагӀба ккун буго. Дицца абулеб буго хӀелкал дие рукӀине кколин, Чакъалалълъейин абуни гьел жиндиего рокьун руго. ГъалбацӀицца, жиндирго кӀалги бацІцІунаго, гьикъун буго: - Кирхха ругел гьел нужер хӀелкал? - абун. - Гьале гьанир, гӀемер рикӏкӀад гьечӀеб нохъода руго. - Балагьея, дир гьудул Цер, гьел хӀелкал дида рихьичӏого, жо ккезе гьечӀо. ХӀукму къотӀизегӀан ццебе, гьезухъ дунги балагьизе ккела. Гьединлъидал нилӏ рилълъинин гьел ругел нохъоде, - ян абун буго ГъалбацӀицца, тӀагӀам бугеб къадикванил ццебеккунго ракӀалълъе рахӀатги бачӀун. Гьенисса гӀалхул хӀайванал, гьезухъ балагьизе, рекерун ун руго нохъоде. Гьенире щвейгун, ГъалбацІ жанибе лIугьине къеркьон буго, амма каратІ цӀакъго гьитӀинаб букӀиналълъ, жибгоги жанибе борчӀизе кӀвечӀого, гьелълъ лъазабун буго: - Гьа, Чакъал, билълъа жанибеги ун, дуцца хӀелкал Дихъе къватӀире регье! - ян. БетӀер къулун, Гъалбацӏие икрамги гьабун, Чакъал паркъун нохъода жанибе тӀерхьун ун буго. Цо лахӏзат ун буго, цоги ун буго, Чакъалин абуни, кинго къватӀибе баккун гьечӀо. Гьениб Царацца абун буго: - Гьай, шайтӀан я, жанибени ана, къватӏибе бачӏунеб гьечӀохха мун! Киналго хӀелкал дуццаго кун лӏугӏизарулел ратичӀонихха, - ян. ГъалбацӀил ццин гьалаглъун буго, цинги жанибеги лӏугьун, хӀалихьатаб Чакъал къватӀибе цӀцӏаян лъазабун буго Царада. Церги гьебсагӀат нохъода жанибе кӀанцӀун ун буго, цинги гьениб, Чакъалалда асскӀоб гӀодобги чӀчӏун, гьелда гьикъун буго: - Гьа, дур иш кин бугеб, гӀакъил? - ан. Чакъалалда щибго жаваб кьезе кӀун гьечӀо, гьеб нечон буго. ГъалбацӀин абуни, Царахъ балагьун чӀчӏун букӀун буго, цинги гӀемер меххалълъ балагьун чӀчӏеялълъ бизарлъараб гъелълъ Цараде гьадин ахӀун буго: - Ле, Цер, къватӀибе лӏугьа! ЧӀалгӀанин гьанже дида нужехъ балагьун чӀчӏей! - абун. - КІваричӀин, чӀчӏун букӀа, гьудул! Нижер, Чакъалалълъулги дирги, рекъел ккун буго гьанже, ян жаваб кьуп буго Царацца. cergi xaqalgi co nu[a' ?iwnigi xi hezeb nu[daSa febede cergi xaqalgi rekerun unel rujun rugo. xaqala' carada hiqun bugo - kinal baTi-baTiyal felmabi duCa Valaralali bicinari?, dir {iriyab cer& - ilan. - diCa ba?dab guroni felmu Valizo. duCa xan Valarab& - ilan hiqun bugo caraCa. - diCani jigogin ba?dab Valana! — yan caraye Dawabgi pun, Dibgo Dindiyego furab qafidayaldaSa be;an]un bugo xaqal. - hedin batani, mun didaSa Vodorab bugeb rafula{a, nu[da mun didaSa Cebe-Cebe bujine Kola, - yan si\irab qafidayalda ma'un bugo caraCa. hel riJade rekerun unel rujun rugo. nu[da heRda dandzwan bugo co baqarab Galbav. henib caraCa xaqalalda abun bugo - ha, co kinab bugonigi si\ruya'e urGe {e{go, guroni GalbaviCa ni` jiyalgo zwaRe rugo! — yan. xaqal carada hardeRe `uhun bugo - dida kinab bugonigi si\ru urGiRe joleb hezo. dudagi {waSar hariRe jwezoni, ni`eda Tade hanDe [walil safat funTana! — yan. - biFuli? kinab faqluya'ul beTerhan mun bugeb& - an abun bugo caraCa helda. - biXante{a hanDe dunnigi Cebe! hel rafabigi abun, cer, xaqalalda Cebe{ungi `uhun, Galbavide{un hadin ja;an bugo - quwat bugeb Galbav, alahaS dur fumru {alat habegi! harula duda, niDer dafbaya'e \ukmu qoTeyan! - abun. - {e{go bice! - yan Cida]ego ja;an bugo heb, hel fal[ul \aywanaRde bergi ?weRabun, cingi kinabday heRul ToCebe kun 'ijilan rajaldegi Kun. - niDeCa Kun bugo jigo \elekogi co fanjudul Tinzgi. hele hel sabab;un niDeda horpob dafba Kun bugo. diCa abuleb bugo \elkal diye rujine Kolin, xaqala'eyin abuni hel Dindiyego ropun rugo. GalbaviCa, Dindirgo jalgi baVunago, hiqun bugo - kir{a rugel hel nuDer \elkal& - abun. - hale hanir, femer riJad hezeb no]oda rugo. - balaheya, dir hudul cer, hel \elkal dida riFizogo, Do KeRe hezo. \ukmu qoTiRefan Cebe, heRu] dungi balahiRe Kela. hedin;idal ni` ri'inin hel rugel no]ode, - yan abun bugo GalbaviCa, Tafam bugeb qadekwanil CebeKungo raja'e ra\atgi bazun. heniSa falhul \aywanal, heRu] balahiRe, rekerun un rugo no]ode. henire ?weygun, Galbav Danibe `uhine qerpon bugo, karaTni vaqgo hiTinab bujina', Dibgogi Danibe borziRe jwezogo, he' ;aRabun bugo - ha, xaqal, bi'a Danibegi un, duCa \elkal di]e qwaTire rehe! - yan. beTer qulun, Galbaviye ikramgi habun, xaqal <arqun no]oda Danibe TerFun un bugo. co la\Rat un bugo, cogi un bugo, xaqalin abuni, kingo qwaTibe baKun hezo. henib caraCa abun bugo - hay, /ayTan ya, Danibeni ana, qwaTibe bazuneb hezo{a mun! kinalgo \elkal duCago kun `ufiRarulel ratizoni{a, - yan. Galbavil Cin halag;un bugo, cingi Danibegi `uhun, \aliFatab xaqal qwaTibe Vayan ;aRabun bugo carada. cergi hebsafat no]oda Danibe janvun un bugo, cingi henib, xaqalalda aSjob fodobgi Zun, helda hiqun bugo - ha, dur i/ kin bugeb, faqil& - an. xaqalalda ?ibgo Dawab peRe jun hezo, heb nexon bugo. Galbavin abuni, cara] balahun Zun bujun bugo, cingi femer me{a' balahun Zeya' biRar;arab he' carade hadin a\un bugo - le, cer, qwaTibe `uha! zalfanin hanDe dida nuDe] balahun Zey! - abun. - jwarizin, Zun buja, hudul! niDer, xaqala'ulgi dirgi, reqel Kun bugo hanDe, - yan Dawab pun bugo caraCa.
- Хъап биххун | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ХЪАП БИХХУН, ХХУЛЖАЛ ГЬАРИЛААН Кире аралали лъачӀого ххулжал тӀагӀун ратанила цо нухалда Мала Нассрудинил. Ваккичӏеб бак течӀила, кирго ратичӀила. Рузман къоялда мажгиталълъуве вилълъанила гьев, гьенибгӀаги цӀеххелин жиндир ххулжал росарав чи гьечӀищали. Какалги ран, гӀадамал рокъо-рокъоре ине лӏугьаралго, Мала Нассрудиницца абунила: - Ле, диналълъул ваццал, цо дагьаб меххалълъ лъалхъе, нужеда абизе жо буго дир. Дагьал ццерегӀан къояз дир рокъосса рикъун ун руго ххулжал. Гьел дие цӀакъ къваригӀуна, гьанив нужеда гьоркьов гьел росарав чи вукӀине ккола. Лъабго къоялълъул болжалалда жанир гьел дир ххулжал нахъруссинаричӀони, цинги нужецца дида гӀайиб гьабуге. Гьебмеххалда дицца дидаго лъараб гьабизе буго, - ян. Гьарарабги хьамурабги жо чӀчӏолев чи вугин гьав Мала Нассрудин, щиб лъалеб, цо кӀудияб балагь бачӀинеги бегьулин гьассул гьал ххулжал сабаблъун дидеян ракӀалдеги ккун, гьел рикъун рукӀарав цо гӀолохъанчиясс, къасси чи кьижараб меххалда, Мала Нассрудинил азбаралде реххун танила ххулжал. Радал вахъарав Мала Нассрудиницца воххуцца холаго нахъе росанила гьел, кигӀан лълъикӀ ккана ратиянги абун. Ххадуссеб анкьицца рузманалде вилълъанила гъов, Мала Нассрудинил ххулжал рикъун рукӀарав гӀолохъанчи, щиб ххабардай буго нахъе реххарал ххулжазулан лъазе. Щванила мажгиталълъуве. Рузманги бан, нахъе унел ругила гӀадамал. ВукӀинего кӀвечӀого гьев цӀцӏогьорасс Мала Нассрудинида гьикъанила: - Мала Нассрудин, ратаралищ дол дур рикъун ун рукӀарал ххулжал? - ан. Ратанилан абунила Мала Нассрудиницца. - Нагагь дол ххулжал нахъе щвечӀого рукӀаралани, щиб гьабизе къассд дур букӀараб, доб дидаго лъараб гьабилаянги абун? - ан цӀехханила гӀолохъанчиясс Мала Нассрудинида. - БатӀияб жо щиб дицца гьабилеб букӀараб? Дирго ххулжал нахъе щвечӀелани, дида ракӀалда букӀана рокъоб букӀараб цо басрияб хъапги биххун, гьелълъул ххулжал гьаризе, - ян абунила Мала Нассрудиницца. Дицца дидаго лъараб гьабилаян абураб жоялълъулги гьеле гьеб магӀна букӀарабхха! ]a< bi{un, {ulDal harilaan kire aralali ;azogo {ulDal Tafun ratanila co nu[alda mala naSrudinil. waKizeb baj tezila, kirgo ratizila. ruRman qoyalda maDgita'uwe wi'anila hew, henibfagi ve{elin Dindir {ulDal rosaraw xi hezi?ali. kakalgi ran, fadamal roqo-roqore ine `uharalgo, mala naSrudiniCa abunila - le, dina'ul waCal, co dahab me{a' ;al]e, nuDeda abiRe Do bugo dir. dahal Cerefan qoyaR dir roqoSa riqun un rugo {ulDal. hel diye vaq qwarifuna, haniw nuDeda horpow hel rosaraw xi wujine Kola. ;abgo qoya'ul bolDalalda Danir hel dir {ulDal na]ruSinarizoni, cingi nuDeCa dida fayib habuge. hebme{alda diCa didago ;arab habiRe bugo, - yan. hararabgi Famurabgi zho Zolew xi wugin haw mala naSrudin, ?ib ;aleb, co judiyab balag bazinegi behulin haSul hal {ulDal sabab;un dideyan rajaldegi Kun, hel riqun rujaraw co folo]anxiyaS, qaSi xi piDarab me{alda, mala naSrudinil aRbaralde re{un tanila {ulDal. radal wa]araw mala naSrudiniCa wo{uCa [olago na]e rosanila hel, kifan 'ij Kana ratiyangi abun. {aduSeb anpiCa ruRmanalde wi'anila Gow, mala naSrudinil {ulDal riqun rujaraw folo]anxi, ?ib {abarday bugo na]e re{aral {ulDaRulan ;aRe. ?wanila maDgita'uwe. ruRmangi ban, na]e unel rugila fadamal. wujinego jwezogo hew VohoraS mala naSrudinida hiqanila - mala naSrudin, ratarali? dol dur riqun un rujaral {ulDal& - an. ratanilan abunila mala naSrudiniCa. - nagah dol {ulDal na]e ?wezogo rujaralani, ?ib habiRe qaSd dur bujarab, dob didago ;arab habilayangi abun& - an ve{anila folo]anxiyaS mala naSrudinida. - baTiyab Do ?ib diCa habileb bujarab& dirgo {ulDal na]e ?wezelani, dida rajalda bujana roqob bujarab co basriyab ]a<gi bi{un, he'ul {ulDal hariRe, - yan abunila mala naSrudiniCa. diCa didago ;arab habilayan aburab Doya'ulgi hele heb mafna bujarab{a!
- Гьунар цӏцӏикӏкӏараб | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ГЬУНАР КИНАЗУЛ ЦІЦӏИКІКІАРАБ? BукӀанила, вукӀинчӀила цоцазул хъатир кӀудияв, цояв цояссе цӀакъ ххирияв кӀиго вацц. КӀияссулго лъимал-хъизанги букӀанила, асскӀорегӀан рукъзалги рукӀанила. Гьел ваццал жалго жидеего ххириял ругел гӀадин, гьезул хъизамалги гьединго лъималги цоял цоязе ххириял рукӀанила. Цоязул рокъоб къварилъи ккани, ялъуни гӀатӀилъи ккани, гьебги кӀиязего бащад букӀанила. ХӀассил, кӀиявго вацц, ваццал гӀадин, ваццазул хъизан-лъималги, ваццазул хъизан-лъимал гӀадин рукӀанила. Ваццазул гьеб божи-рокьиги гьуинлъиги жидер гьунарлъун, жидеда хъизан-лъимал куцазе лъайлъун бихьулаанила, цинги кӀиявго ваццассул чӀчӏужуялда гьеб иш жиндиргоги жиндир дандияй нусалълъулги гьунар букӀин лъалаанила. Щиялълъ жиндирго россассда гьеб гьунар жиндир букӀин бичӀчӀизабулаанила. «Нуж, бихьиналищ, лълъикӀал, ниж, руччабийищ лълъикӀал» абураб суалги россассе кьун, гьелда тӀассан къецц кколаанила. Цо къоялълъ гьитӀинав ваццасс цо куй хъун букӀанила, асскӀов кӀудияв ваццассулги жиндиргоги васалги рукӀанила. ГьитӀинав ваццасс лъималазухъе цо-цо ургьиссала кьунила. Кодор гьелги кӀанцӀезарулаго, гьев кӀиявго вас кӀудияв ваццассул бакӀалде анила. Нилӏ ваццги ваццассул хъизамгиян холел рукӀунин, нилӏецца куй хъун букӀарабани, кӀудияб ургьиссала гьессул васассухъе кьун, гьитӀинаб нилӏерго васассухъе кьелаан. Бихьулищ, гъоз, нилӏер васассухъе гьитӀинаб кьун, жидерго васассухъе кӀудияб кьун буго, - ян гъулгъудизе лӏугьанила кӀудияссул чӀчӏужу. - Нилӏ гьелилан холел ругеб меххалълъ, гьезул балагьи гьединабищхха букӀараб, ан кӀудияв ваццассулги ракI квешлъанила. ГьитӀинав ваццги ахӀун, гьессие бадибчӏвай гьабизе, гьессде семизе, вагъизе ххиял гьабунила гьесс. ЧӀчӏужу, лълъикӀав чияссул пирххи-кьвагьи бихьулищан, балъго елъанхъилей йикӀанила. Цинги гьелълъ россассда абунила: - ГӀадаллъуге, дир гъарин, цо куялда кӀиго батӀияб: цо кӀудияб, цо гьитӀинаб ургьиссалаги букӀунаро, руччабаз бица-бицаралдаги божун, ххеххдаризе бегьуларо, - ян. Цинги гьессда бичӀчӀанила ваццлъиги, божилъи цӀуниги, гьоркьоб гьогьен ккезабиги руччабазда бараб букӀин. hunar kinaRul ViJarab& wujanila, wujinzila cocaRul ]atir judiyaw, coyaw coyaSe vaq {iriyaw jigo waC. jiyaSulgo ;imal-]iRangi bujanila, aSjorefan ruqRalgi rujanila. hel waCal Dalgo Dideyego {iriyal rugel fadin, heRul ]iRamalgi hedingo ;imalgi coyal coyaRe {iriyal rujanila. coyaRul roqob qwari;i Kani, ya;uni faTi;i Kani, hebgi jiyaRego ba?ad bujanila. \aSil, jiyawgo waC, waCal fadin, waCaRul ]iRan-;imalgi, waCaRul ]iRan-;imal fadin rujanila. waCaRul heb boDi-ropigi huin;igi Dider hunar;un, Dideda ]iRan-;imal kucaRe ;ay;un biFulaanila, cingi jiyawgo waCaSul ZuDuyalda heb i/ Dindirgogi Dindir dandiyay nusa'ulgi hunar bujin ;alaanila. ?iya' Dindirgo roSaSda heb hunar Dindir bujin biZiRabulaanila. «nuD, biFinali?, 'ijal, niD, ruXabiyi? 'ijal» aburab sualgi roSaSe pun, helda TaSan qeC Kolaanila. co qoya' hiTinaw waCaS co kuy ]un bujanila, aSjow judiyaw waCaSulgi Dindirgogi wasalgi rujanila. hiTinaw waCaS ;imalaRu]e co-co urhiSala punila. kodor helgi janveRarulago, hew jiyawgo was judiyaw waCaSul bajalde anila. ni` waCgi waCaSul ]iRamgiyan [olel rujunin, ni`eCa kuy ]un bujarabani, judiyab urhiSala heSul wasaSu]e pun, hiTinab ni`ergo wasaSu]e pelaan. biFuli?, GoR, ni`er wasaSu]e hiTinab pun, Didergo wasaSu]e judiyab pun bugo, - yan GulGudiRe `uhanila judiyaSul ZuDu. - ni` helilan [olel rugeb me{a', heRul balahi hedinabi?{a bujarab, an judiyaw waCaSulgi raj kwe/;anila. hiTinaw waCgi a\un, heSiye badibzway habiRe, heSde semiRe, waGiRe {iyal habunila heS. ZuDu, 'ijaw xiyaSul <ir{i-pwahi biFuli?an, ba;go e;an]iley yijanila. cingi he' roSaSda abunila - fadal;uge, dir Garin, co kuyalda jigo baTiyab, co judiyab, co hiTinab urhiSalagi bujunaro, ruXabaR bica-bicaraldagi boDun, {e{dariRe behularo, - yan. cingi heSda biZanila waC;igi, boDi;i vunigi, horpob hohen KeRabigi ruXabaRda barab bujin.

