top of page

Результаты поиска

Search this site

2070 results found with an empty search

  • Церги хӏинчӏчӏги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Церги хIинчIчӏги БукIанила ГьентIа росдада асскIоб цо рохьоб цер. Царада рагIун буго цо росулӏ бертаде хIадурлъулел ругилан. Царацца хIукму гьабун буго берталълъе ине. Гьелда ракIалда букIун буго гьенисса щибгIаги бикъизе щвелин абун: яги гьан, яги гIанкIу. Инаго нухда царада бихьун буго чIирчIидулеб хIинчIчӏ. Царацца абун буго хIинчIчӏалда: – Дур чIирчIирдул берцинлъи. Дида кидаго рагIичIо гьедигIан берцинаб чIирчIиди. Дида ракIалде ккола гьедигIан берцинаб гьаракь гьабизе кIола дургIадинал беразда. – Гуро, – ян – ахIдон буго биххун ххутIараб хIинчIчӏ. – Беразда гьаракь гьабизе кIолищ? Царацца абун буго: – Гьедин батани бералги къанщун цо ахIун биччанте. Гьеб меххалълъ дида абизе кIола дуцца бераз ахIулеб гьечIилан. ХIинчIчӏ, боххизеги боххун, къанщун бералгун бакъан биччазе лӏугьун буго. Бигьа гьабун асскIобеги лӏугьун, хапун ккун, царацца хIинчIчӏ кванан буго.

  • Тӏутӏги найги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ТӏУТӏГИ НАЙГИ Цо пуланаб къоялълъ Тlутlги Найги цоцада асскIоре ккун руго. ТIотIоцца Найидеххун, жиндирго къварилъи бицун, гьадин абун буго: - Гьал гIадамаз гьабулеб мекъаб жоялълъул магIна кинго бичIчIуларо дида. Дун гьаз рукъзабахъа къватIибе бачахъула, батIи-батIиял жал ургъун, дун хвезабула, щиб rIaмал гьабунги тIутIал тIагIинаризе хIаракат бахъула. Дуейин абуни, тIулби гьарула, дур тIалаб цIакъ гьабула, ххасало ригьниб жаниб лъола, ихдал цо-цо меххалда дуе квине гьоцIцӏогицин кьола. Гьаб дур бегIераб ххочодасса хIинкъун ратилахха гьал гIадамаз дур хIурмат-хъатир гьабулеб, - ан. Найицца гьелълъие гьадинаб жаваб кьунила: - БегIераб ххочодасса хIинкъун, хIурмат гьабулебани, кьужнайилги кIкIарадулги хIурмат гьабилаан гIадамаз, гIадамазда асскIобни гьезулги къадру дуралдасса цIцӏикIкӏараб гьечIо. Мун гIадамазухъе, батIи-батIиял унтабиги рачун бачIуна, дуцца гьезул квен-тIехх, ретIел-хьит, цинги цоги жо чорок гьабула, мун хIанчIола. Диццайин абуни нус-цус батIияб унтуе дару-дарманлъун чIчӏолебги, квине тIarIaмабги гьоцIцӏо кьола, гьединго гIемер жоялълъе къваригIунеб xIe кьола. Гьеле гьединлъидал бокьула гIадамазе дун, - ан. TuTgi naygi co <ulanab qoya' TuTgi naygi cocada aSjore Kun rugo. ToToCa nayide{un Dindirgo qwari;i bicun hadin abun bugo - hal fadamaR habuleb meqab Doya'ul mafna kingo biZularo dida. dun haR ruqRaba]a qwaTibe baxa]ula, baTi-baTiyal Dal urGun, dun [weRabula, ?ib famal habungi TuTal TafinariRe \arakat ba]ula. duyeyin abuni, Tulbi harula, dur Talab vaq habula, {asalo rihnib Danib ;ola, i[dal co-co me{alda duye kwine hoVogicin pola. hab dur beferab {oxodaSa \inqun ratila{a hal fadamaR dur \urmat-]atir habuleb, - an. nayiCa he'iye hadinab Dawab punila - beferab {oxodaSa \inqun, \urmat habulebani, puDnayilgi Jaradulgi \urmat habilaan fadamaR, fadamaRda aSjobni heRulgi qadru duraldaSa ViJarab hezo. mun fadamaRu]e, baTi-baTiyal untabigi raxun bazuna, duCa heRul kwen-Te{, reTel-Fit, cingi cogi Do xorok habula, mun \anzola. diCayin abuni nus-nus baTiyab untuye daru-darman;un Zolebgi, kwine Tafamabgi hoVo pola, hedingo femer Doya'e qwarifuneb \e pola. hele hedin;idal bopula fadamaRe dun, - an.

  • Сихӏирлъи лълъие | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    СИХӏИРЛЪИ ЛЪЛЪИЕ КЬУРАБ? Тӏоццебе дунял бижараб меххалълъ, кинабниги рухӏчIагояб жоялълъе бажари бикьулеб букӏанила. Гьеб щванила гIадамассе. Цогидаб рухӏчӏагояб щинаб жоялълъ: хIутl-хъумуралълъ, хIанчIчӏаз, жанавараз, ччугIбуз - киназго ахIи-хIур, хъуй багъаризабунила, лълъицца щиб абулебги, гьабулебги бугебали лъалеб хIал букӏичIила. Гьединаб рихха-ххочиялда, ахIи-хIуралда rьоркьоб ГIанкlуялълъ жиндиего куркьби росанила, боржине гьунар босизе рекIеда батичIила, БацIицца жиндиего щулиял боххдул тIасса рищанила, гIакъилаб бетIерни босизе кколеблъи кIочанила. ХIайваналниги, хIинчI-хъумурниги, ччугIбиниги щиб-кинали рекIеда ратилелде, гIодоб реххун ххутIун букIанила сихIирлъи. Асскlоссан унев вукIарав инсанассда бихьун, гьесс гьеб жиндиего босанила. Царада бихьанила гIадамасс жиндиего цо жо ракьалдасса тIаде босулеб, цинги гьелда гьеб бичӏчIанила щиб жояли, цинги жиб дагьаб кватIун ккараблъиги лъан, Царацца кин бугониги цо махI ссунтIанила сихIирлъиялда, цо дагьабгIаги гьалълъул бутIа диего щун лълъикIилан. Гьелдасса ххадур гIемерал къоял анила, жанаваралниги, хIанчIчӏиниги, ччугIбиниги жиде-жидер бакIалде руссанила. Цо къоялда гIурулӏа къватIибе 6етIер баккизабураб Ччугlида рихьанила асскIоб бугеб гъотIода рещтIун хӏанчӏчIи. Гьеб ахIданила хIанчIчӏазде. - Ле хIанчIчӏи, гъоб сихIирлъи лълъие щвараб? - ан. Сихӏирлъи гӏадамассе щванилан жаваб кьунила хӏанчӏчӏаз. ЧчугIа щибго абичӏого, дагьабги рикӏкIадегlан лълъедон унеб букIанила, гьелда бихьанила гӏурул рагIалда чIван унеб цо Бацӏ. ХIанчӏчӏазда гьикъарабги кIочон, гьелълъ Бацӏидаги гьикъанила гъоб сихIирлъи лълъие щварабилан. БацIиццаги абунила гъоб гIадамассе щванилан. Гьеб лълъикӏ ккун бугин абунила Ччугӏицца, гьанже нилӏер цоцазда ракӏ хвезе бакӏ ххутIун гьечIин. Гьениб асскIоссан унеб букIараб Царада рагIанила ЧчугIицца абулеб жо. «ЛълъикIаб жого щиб гьаниб бугеб, - абун кIалъанила Цер, - гьанже гIадамасс я ракъдада ниж, я лълъадалӏ нуж рахIаталда тезе гьечIо. БацIги Ччугӏаги Царацца бицараб жоялда гIажаиблъи гьабун, гьакIкIан кIалгун, ралагьун ххутIанила, цинги гьениве тIаде вачIарав гIадамасс гьел кIиялго ккунила. Гьеб бихьараб Цараццаги, хьвагIун ххалатаб рачIчӏгун, гьеб рахъго танила. si\ir;i 'iye purab& ToCebe dunyal biDarab me{a;, kinabnigi ru\zagoyab Doya'e baDari bipuleb bujanila. heb ?wanila fadamaSe. cogidab ru\zagoyab ?inab Doya' - \uT-]umura', \anZaR, DanawaraR, XufbuR - kinaRgo a\i-\ur, ]uy baGariRabunila, 'iCa ?ib abulebgi, habulebgi bugebali ;aleb \al bujizila. hedinab ri{a-{oxiyalda, a\i-\uralda horpob fanjuya' Dindiyego kurpbi rosanila, borDine hunar bosiRe rejeda batizila, baviCa Dindiyego ?uliyal bo{dul TaSa ri?anila, faqilab beTerni bosiRe Koleb;i joxanila. \aywanalnigi, \inZ-]umurnigi, Xufbinigi ?ib-kinali rejeda ratilelde, fodob re{un {uTun bujanila si\ir;i. aSjoSan unew wujaraw insanaSda biFun, heS heb Dindiyego bosanila. carada biFanila fadamaS Dindiyego co Do rapaldaSa Tade bosuleb, cingi helda heb biZanila ?ib Doyali, cingi Dib dahab kwaTun Karab;igi ;an, caraCa kin bugonigi co ma\ SunTanila si\ir;iyalda, co dahabfagi ha'ul buTa diyego ?un 'ijilan. heldaSa {adur femeral qoyal anila, Danawaralnigi, \anZinigi, Xufbinigi Dide-Dider bajalde ruSanila. co qoyalda furu`a qwaTibe beTer baKiRaburab Xufida riFanila aSjob bugeb GoToda re?Tun \anZi. heb a\danila \anZaRde. - le \anZi, Gob si\ir;i 'iye ?warab& - an. si\ir;i fadamaSe ?wanilan Dawab punila \anZaR. Xufa ?ibgo abizogo, dahabgi riJadefan 'edon uneb bujanila, helda biFanila furul rafalda zwan uneb co bav. \anZaRda hiqarabgi joxon, he' bavidagi hiqanila Gob si\ir;i 'iye ?warabilan. baviCagi abunila Gob fadamaSe ?wanilan. heb 'ij Kun bugin abunila XufiCa, hanDe ni`er cocaRda raj [weRe baj {uTun hezin. henib aSjoSan uneb bujarab carada rafanila XufiCa abuleb Do. «'ijab Dogo ?ib hanib bugeb, - abun ja;anila cer, - hanDe fadamaS ya raqdada niD, ya 'ada` nuD ra\atalda teRe hezo. bavgi Xufagi caraCa bicarab Doyalda faDaib;i habun, haJan jalgun, ralahun {uTanila, cingi heniwe Tade wazaraw fadamaS hel jiyalgo Kunila. heb biFarab caraCagi, Fwafun {alatab raZgun, heb ra]go tanila.

  • Ургъел гӏемерав чи | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    УРГЪЕЛ ГІЕМЕРАВ ЧИ ВукӀанила вукӀинчӀила цӀакъ ургъел гӀемерав, росулӏ кколеб щинаб жоялълъул пикраби гьарун, габур тӀеренлъарав цо чи. Цо нухалълъ гьессда рагӀун буго цо лълъилалиго хӀамицца гӀундулги рачІчӏги гьечӀеб кӀерт гьабунилан. «Вай, пулан, вай, пулан!» абун пашманлъанилахха гьев чи, битӀахъе кӀудияб балагь бачӀараб гӀадин. - Щай мун пашманлъулев? - ан гьикъанила гьессда мадугьаласс. - ХӀамие гьедин лълъикӀ букӀина гури; гӀемериссеб гӀундузда, рачӀчӏалда гурищ хьвагӀараб хьоп щолеб, гьанже рачІчӏги гӀундулги гьечӀеб гьелда дагьго гурони кьабиларо. - ХӀамида гуро дир ракӀ гурхӀун бугеб, хӀамил бетӀергьанассда, - ян, - абунила гьев чиясс. - Гьа, ина гъов гьирихъ, бала цӀцӏад, багъарила хӀарщ, хӀарщулӏ къала хӀама. Цинги кквезе рачІчӏги гӀундулги гьечӀони, кин гъосс хӀама тӀаде бахъинабилеб? Вай, пакъир! urGel femeraw xi wujanila wujinzila vaq urGel femeraw, rosu` Koleb ?inab Doya'ul <ikrabi harun, gabur Teren;araw co xi. co nu[a' heSda rafun bugo co 'ilaligo \amiCa fundulgi raZgi hezeb jert habunilan. «way, <ulan, way, <ulan!» abun <a/man;anila{a hew xi, biTa]e judiyab balah bazarab fadin. - ?ay mun <a/man;ulew& - an hiqanila heSda maduhalaS. - \amiye hedin 'ij bujina guri, femeriSeb funduRda, raZalda guri? Fwafarab Fo< ?oleb, hanDe raZgi fundulgi hezeb helda dahgo guroni pabilaro. - \amida guro dir raj gur\un bugeb, \amil beTerhanaSda, - yan, - abunila hew xiyaS. - ha, ina Gow hiri], bala Vad, baGarila \ar?, \ar?u` qala \ama. cingi KweRe raZgi fundulgi hezoni, kin GoS \ama Tade ba]inabileb& way, <aqir!

  • Щудукӏай | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ШУДУКIАЙ (Маргьа) ЙикIанила, йикIинчIила, ШудукIалълъул, щуго яс йикIанила. Цо къоялълъ ШудукIалълъ ясазе карщ гьабунила. Гьеб чIчIикIизе гъудал ратичIила. Пайда гьечIилан ШудукIай гъудазе цIцIул къотIизе рохьое анила. Рохьое унаго, гьалда данде кканила цо бацI. БацIицца гьикъанила: «Кие мун уней йигей?» абун. – Дунали рохьое уней йиго. Верехха, дуцца гьадал дир лъимал кваназе гурин! Рахан нуцIцIагин таралин дицца гьел – анги абун ШудукIай рохьое ялагьун анила. Гьеб рагIаги дир гIиндаян, бацI, боххиялълъ, лъабцIцIул кIанцIун, ШудукIалълъул рагьде щванила. – «ШудукIалълъул щуго яс, нуцIцIа ричIе, эбел хвадал!» – ян ахIанила. – Рагьиларо, мун нижер эбел гуро, нижер эбел баргъичазул килщал цIурай, курхьабазул гъажал цIурай йикIанилан абунила ясаз. Цинги бацIицца рохьобеги ун, пенкьелодул курхьаби гьарунила, макъаридул баргъичал гьарунила. ТIад буссун лъималазул кIалтIе щванила. НуцIцIил картIиниссан баргъичалги, курхьабиги рихьун тун ххадуб, ясаз бацI жанибе биччан танила, Жанибе борчIарабго бацIицца цо яс мокърукь яхъанила, цо яс ссанкIида нахъа къазаюнила, цояй рахъдалълъ къазаюнила, кIиго яс кванила. ШудукIалълъул гьацIцIул, нахул, хьодол хъуби рукIанила, гьелги чIчIикIанила. ТIири течIого карщги чIчIикIанила, кутакалда чехьги цIун, бацI цо бакIалда бегизе анила. Гьениб рахIаталда кьижанила. ЩудукIай рокъое юссанила: цониги яс гьечIила. – «ЩудукIалълъул щуго яс кир ругел, эбелхвадалан» ахIтIанила. Дун гьаний йиго – ян цояй ссанкIида нахъассан ахIданила. Дун гьаний йигилан цояй мокърокьан, цояй рахъдалълъан ахIданила. КIигояй тIагIун ятанила. ГIоданила, йортанила чIчIичIчIиданила, хъвагIаданила, хъерщеданила, тIирщаданила. Карщалде рортани, карщ гьечIила, нахалде, гьоцIцIоялде якканила – гьебги гьечIила. Чараги бухIун, чуриги бухIун ххутIанила. БацIие гьабизе кIолеб щибниги жо бугеб ани, ясалго кIваричIоанилан ШудукIай кьвагьулей, юхIулей йикIанила. ШудукIалде асскIобе зигара гьабун цер бачIанила Гьелълъ ШудукIалда, бацIие хIилла жиндицца гьабилин, жиндие тIатIулълъ ххинкIалги гьаруни, квасул бусенги тIамунийилан абунила. ШудукIайги гьелда рекъанила. Къассде ШудукIалълъ ясазеги жиндиегоги тIатIулълъ ххинкIал гьарунила, царае тIорччол ххинкIал гьарунила. ХхинкIал кунеб меххалълъ цер ххинкIазул лъахь-лъахьи бугилан зигарданила, гьеб дурго ца-кIалалълъул чIахIалъиялълъул жо бугилан ШудукIалълъги абунила. Регизе мехх щванила. Яхъун ШудукIалълъ царае зазил бусен тIамунила. Ясазеги жиндиегоги квас-квасул бусен тIамунила. Цер босен хIенчолеб бугилан зигарданила. ШудукIалълъ, гьеб дурго ракьа-гьаналълъул чIахIалъиялълъ бугеб жо бугилан абунила. Абухъего гьеб гьедин батизе бегьулилан, зигара тун цер кьижанила. Радал цер къватIибе бахъанила бацIида ххадуб лIугьанила. Рохьоб добе баккун, гьанибе баккун, бацI балагьанила. АсскIобе билъун гара-чIваранила. Гьадин-гьадинан гьоркьоб гьудул-гьалмагълъи ккезабунила, цо хъещтIезе ун лълъикI гуродаян тIаделъанила. БацI цIакъ букIкIуркIахъданила. Чехьги цIун букIаго хъещтIезего щай абун зигарданила. Жибго бегун букIун, царал ххабар-кIалалълъухъ гIенеккун чIчIезе бокьун буканила бацIие. Цер кинго тIасса бичIичIила, хъещтIезе бачанила. Цин рахъун чIчIун хъещтIанила, гьанже гIодор чIчIун хъещтIон лълъикIин, гьанже «мукIусгъей» гьабун лълъикIилан, царацца батIи-батIиял къагIидаби малълъанила. Бищун ссанагIатаб куц ккарабго цер бацIида гьоркье кIущанила. БацI цIералда рекIун ххутIанила. Гьеб меххалълъ цер, – махил росе, миккил росе ян ахIданила. ШудукIай тIилалгун, гIурдулгун тIаделъанила. БацIида гIадалълъ цо тIил банила, магIарзухъан цояй яс къватIие кIанцIун ячIанила, цоги банила – цоги кIанцIун ячIанила, гьагъадин балаго, хьодол, нахул, гьацIцIул хъуби, карщ, турхьиялда къватIире ралел рукIанила.. Ццим буссунарого ШудукIай кьабулейго-кьабулей йикIанила. БацIиде цIакъго хIал кканила. Бахъун туркIанила, цIцIороде кIудияб тIомги бахъун бачIанила, бацIги борчIанила. БацI борчIарабго, цер лъутанила – бацI ххадуб бортанила. Цер цо картIинибе борчIун унеб букIанила, бацIихъе рачIчI кквезе щванила гьелълъул. Царацца гьеб меххалълъ бацIиде: – дир рачIчI кквезе щвечIеб жо! КIал-диб тIурччи ккураб жо! – ян ахIанила. – Вагь! Дир кIалдибе ккараб жо рачIчI гуреб, тIурччидаян, бацIицца кIал гьакIкIанила. Цер тIубан картIинибе борчIанила. Кван щинабги магIазухъан бачIун, церги кодоссан борчIун ххутIанила бацI. Нахъе балагьалдасса цIунагиян, ясалги данде рачун ШудукIайги танила.

  • Къайицадахъал | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    КЪАЙИЦАДАХЪАЛ РукӀанила, рукӀинчӀила цо Церги, Циги, БацІги. Къайицадахъаллъун рукӀун, гьезул бекьаризе цо гамушги букӀанила. Кутнада гьадаб гамушги бан, МукӀучихханассул ракьалда рекьарулел рукӀанила ихдал гьел. Рекьи лӏугӀараб меххалълъ квинеян абун, гьез цо хъаба нахулги, цо хъаба гьацӀцӏулги, цо хъаба урбадулги танила рохьоб жидерго къавуда баххчун. Рокъор ругел цӏцӏорорагӏаз рахӀат хвезабун букӀанила Царал. Гьабизе хӀила ургъулаго, кӀиго-лъабгониги къо банила гьалълъ. Цо къоялълъ, тӀадран рекьарулаго, гьезда асскӀоссан цо чи унев вукӀанила, ахӀулаго кечІгун, гьазухъги валагьулаго. Цицца гьикъанила: - Ялъачи, гьадав чиго щибизе ахІдолев, - ан. Дун инагури цӀеххезе гьабсагӀатанги абун, бортун анила Цер. Ццевесса чиги тӀерхьанила, ххадуб Церги тӀагӀанила. Цо заманалдассан баккун бачӀанила Цер, бигьа гьабун, цӀакъ ургъелги ккун. - Щиб лӏугьараб, щай ургъел чІвараб? - ан гьикъанила Цицца. - Лӏугьараб жони нилӏ киналго роххизе гӀадинаб буго, диде тӀадени ккараб намус буго кӀудияб, - ан жаваб гьабунила Царацца. - ВахІ, нилӏ киналго роххулеб, мун пашманлъулеб жо щиб гьеб, - ан абунила БацӀицца. - Нилӏер гьав Мукучихханассе вас гьавун вугин абун, роххел бицине витIун вукӀун вуго гьадав чи, гьев васассда цӀцӏар лъезе дунги ахӀулеб буго. Гьанже, гьессда лъезе цӀцӏар батуларого, дир яхӀ хун буго. Лъаларо, инего инчӀогойищ чӀчӏелебали, - ян жаваб кьунила гьелълъ. - Воре, воре, инчӀого бегьиларо; гъоссул ракьги бекьун, цӀцӏар лъезе ахӀараб меххалълъ, инчӀого бегьулеб жо гуро, - ян абунила БацӀиццаги Циццаги. Хьвархьвалаго анила Цер гьезда бихьулебгӀан бакӀалдассан. ГохІги бегун, хъархъазулӏе ккейгун, кӀваралълъ бекеранила гьеб. Рокъобе щварабго, Цер лӏугьанила, рагьун хъубигун, гьоцӀцӏо-нах чӏчӏикӀизе. ЛълъикӀ лъабалдаго тӀассаги чӀчӏикӀун, нахъеги щула гьарун кӀалтӀа бегун, гьелги тун, билълъанила нахъбуссун, ахӀулаго кечІгун. Гьеб тӀаде щварабго, цӀехханила Циццаги БацӀиццаги цӀцӏар щибин лъурабилан. - КӀалтӀубахъ абун лъуна, ян абунила Царацца, щибниги нечечӀого. ЦӀакъ лълъикӀаб цӀцӏар лъун бугин абун, хващтӀан рекьаризе лӏугьанила. Нахъияб къоялълъ балагьулеб букӀанила Цер рахъ-рахъалде. Вихьанила гьелда цІакъго рикӏкӀадассан унев цо чи. Валлагь, гьадав чиги дида ххадув вачӀунев чи вугоянги абун, бекеранила Цер, Циги БацІги ххадур ралагьунги тун. ГохІда нахъаги тирун, нахъбуссун бачӀанила Цер. МукӀучихханассе цоги вас гьавун рагӀула, гьессдаги цӀцӏар лъезе кколеб буго диццаян ххабар бачӀун буго хханассдассан абун, цӀакъ ине бокьуларого гӀадин, зигардизе лӏугьанила Цер. ИнчӀого бегьилароян абун, Циццаги БацӀиццаги балагьизабунила Цер. Бурбудулаго анила Цер, бокьулареб ххвелги гьабун, гохӀде нахъени щварабго, ххазабунила гьелълъ. Рокъобе щвейгун, рагьанила гьелълъ лъабабго хъабаялълъул кӀал, лӏугьанила чӀчӏикӀаризе. Танкан бакьулӏалдассаги эххе ккезарунила хъуби. АхӀулаго кечӀгун, билълъанила гьеб бигьа гьабун къайцадахъазде асскӀобе. ТӀаде щвейгун, гьез цӀехханила гьелда цӀцӏар щибин лъурабилан. - Бакьхен абун лъуна, - ян жаваб гьабунила гьелълъ. Лъабабилеб нухалълъ анила Цер, гьадавго МукӀучихханассул васассул багьанаги бачун. Лъабабилеб нухалълъ Царацца лъабабго хъаба бацІцӀад гьабун гӀодоб лъунила. Нахъбуссун бачӀун, къайцадахъаз щиб цӀцӏар лъурабилан, цӀеххараб меххалълъ, абунила гьелълъ хханассул васассда цӀцӏар ТӀагӀен абун лъунин. Рекьиги лӏугӀун, паракъалъун, рилълъанила гьел рокъоре. Цидаги БацӀидаги ракӀалда бугила, гӀодобе биччан ракӀгин, гьоцІцӏо-нах, урба чӀчӏикӀизе, киндай гьеб хӀилаялдасса чӀвачӀого борчӀилебан, Царада ракӀалдаги бугила. Щванила рокъоре, росанила ццере хъуби, ругила чӀан-чӀорого! Квалквадулел гъол рукӀаго, Царацца тӀурун биччан танила. Ххадур ралагьун къайцадахъалги ххутӀанила. qayicada]al rujanila, rujinzila co cergi, cigi, bavgi. qayicada]al;un rujun, heRul bepariRe co gamu/gi bujanila. kutnada hadab gamu/gi ban, mujuxi{anaSul rapalda reparulel rujanila i[dal hel. reji `ufarab me{a' kwineyan abun, heR co ]aba nahulgi, co ]aba haVulgi, co ]aba urbadulgi tanila roFob Didergo qawuda ba{xun. roqor rugel VororafaR ra\at [weRabun bujanila caral. habiRe \ila urGulago, jigo-;abgonigi qo banila ha'. co qoya', Tadran reparulago, heRda aSjoSan co xi unew wujanila, a\ulago kezgun, haRu]gi walahulago. ciCa hiqanila - ya;axi, hadaw xigo ?ibiRe a\dolew, - an. dun inaguri ve{eRe habsafatangi abun, bortun anila cer. CeweSa xigi TerFanila, {adub cergi Tafanila. co RamanaldaSan baKun bazanila cer, biha habun, vaq urGelgi Kun. - ?ib `uharab, ?ay urGel zwarab& - an hiqanila ciCa. - `uharab Doni ni` kinalgo ro{iRe fadinab bugo, dide Tadeni Karab namus bugo judiyab, - an Dawab habunila caraCa. - wa\, ni` kinalgo ro{uleb, mun <a/man;uleb Do ?ib heb, - an abunila baviCa. - ni`er haw mukuxi{anaSe was hawun wugin abun, ro{el bicine wiTun wujun wugo hadaw xi, hew wasaSda Var ;eRe dungi a\uleb bugo. hanDe, heSda ;eRe Var batularogo, dir ya\ [un bugo. ;alaro, inego inzogoyi? Zelebali, - yan Dawab punila he'. - wore, wore, inzogo behilaro, GoSul rapgi bepun, Var ;eRe a\arab me{a', inzogo behuleb Do guro, - yan abunila baviCagi ciCagi. FwarFwalago anila cer heRda biFulebfan bajaldaSan. go\gi begun, ]ar]aRu`e Keygun, jwara' bekeranila heb. roqobe ?warabgo, cer `uhanila, rahun ]ubigun, hoVo-na[ ZijiRe. 'ij ;abaldago TaSagi Zijun, na]egi ?ula harun jalTa begun, helgi tun, bi'anila na]buSun, a\ulago kezgun. heb Tade ?warabgo, ve{anila ciCagi baviCagi Var ?ibin ;urabilan. - jalTuba] abun ;una, yan abunila caraCa, ?ibnigi nexezogo. vaq 'ijab Var ;un bugin abun, [wa?Tan repariRe `uhanila. na]iyab qoya' balahuleb bujanila cer ra]-ra]alde. wiFanila helda vaqgo riJadaSan unew co xi. walah, hadaw xigi dida {aduw wazunew xi wugoyangi abun, bekeranila cer, cigi bavgi {adur ralahungi tun. go\da na]agi tirun, na]buSun bazanila cer. mujuxi{anaSe cogi was hawun rafula, heSdagi Var ;eRe Koleb bugo diCayan {abar bazun bugo {anaSdaSan abun, vaq ine bopularogo fadin, RigardiRe `uhanila cer. inzogo behilaroyan abun, ciCagi baviCagi balahiRabunila cer. burbudulago anila cer, bopulareb {welgi habun, go\de na]eni ?warabgo, {aRabunila he'. roqobe ?weygun, rafanila he' ;ababgo ]abaya'ul jal, `uhanila ZijariRe. tankan bapu`aldaSagi e{e KeRarunila ]ubi. a\ulago kezgun, bi'anila heb biha habun qayicada]aRde aSjobe. Tade ?weygun, heR ve{anila helda Var ?ibin ;urabilan. - baphen abun ;una, - yan Dawab habunila he'. ;ab~abileb nu[a' anila cer, hadawgo mujuxi{anaSul wasaSul bahanagi baxun. ;ab~abileb nu[a' caraCa ;ababgo ]aba baVad habun fodob ;unila. na]buSun bazun, qayicada]aR ?ib Var ;urabilan, ve{arab me{a', abunila he' {anaSul wasaSda Var Tafen abun ;unin. repigi `ufun, <araqa;un, ri'anila hel roqore. cidagi bavidagi rajalda bugila, fodobe biXan rajgin, hoVo-na[, urba ZijiRe, kinday heb \ilayaldaSa zwazogo borzileban, carada rajaldagi bugila. ?wanila roqore, rosanila Cere ]ubi, rugila zan-zorogo! kwalkwadulel Gol rujago, caraCa Turun biXan tanila. {adur ralahun qayicada]algi {uTanila.

  • Бищунго къуватаб | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    БИЩУНГО ЩИБ КЪУВАТАБ? Цо нухалда квачараб ххасало лъарахъе лълъим гьекъезе араб Бече, цIцӏердассан хъуштIун, гӏодоб речӏчӏун буго. Гьеб бихьун буго Бече гьекъезе бачун вачӏарав гьитIинав васассда, Къебедида. Къебедицца Бачида гьикъанила: - Бече, ва Бече, мун цIакъго къуватабищ бугеб, ялъуни дагьгойищ? — ан. - Дун къуватаб букIарабани, гьудул Къебед, дун лълъеда чIвараб цIцӏороцца гIодоб лъелароан, - илан абун буго Бачицца. Васасс ЦIцӏорода гьикъанила: - Цlцӏер, ва Цlцӏер, мун къуватаб бугищ? — ан. - Дун къуватаб букIарабани, Бакъуцца биинабилароан. Васасс Бакъуда гьикъанила: - Бакъ, мун киназдассаго къуватабищ бугеб? - ан. - Киназдассаго дун къуватаб букIарабани, Накlкӏуцца дун баххчилароан. Васасс НакIкIуда гьикъанила: - НакIкI, ва НакIкI, мун ссундассаго къуватабищ бугеб? - ан. - Ссундассаго дун къуватаб бугебани, гIиссинаб ЦIцӏадацца дун бихха-ххочизабилароан. Васасс Цlцӏадада гьикъанила: - ЦIцӏад, мун ссундассаго къуватабищ бугеб? - ан. - Дун ссундассаго къуватаб бугебани, Ракьуцца дун жанибе кIкIвинароан. Васасс Ракьуда гьикъанила: - Бицея, Ракь, мун бищунго къуватабищ кколеб дунялалда? – ян. - Дунялалда дун бищун къуватаб бугебани, дида тIад, Ххер бижилаанищ? Васасс Ххарида гьикъанила: - Ххер, бицея, бищунго къуватаб мунищ кколеб? - ан. - Дун бищунго къуватаб бугебани, дун гIияцца квинароан. Васасс гIияда гьикъанила: - Дир ххириял чахъаби, дунялалда бищунго къуватал нужищ? - ан. - Ниж бищунго къуватал ругелани, вехьасс доре-гьанире хъамилаанищ ниж? - Вехь, бицея, бищун дунялалда къуватав мунищ? -абун гьикъанила Къебедицца. - Дун бищунго къуватав вукIаравани, дир тIомохьитазул чIалал ГIонкIкlоцца квинаандай? - Бицея, Гlункlкl, дунялалда бищунго къуватаб жо мунищ кколеб? - ан гьикъанила васасс. - Дун бищунго къуватаб бугебани, Катицца дун кунебандай? Васасс Катида цIехханила: - Бицея, дир Ицико, гьаб дунялалда бищун къуватаб мунищ кколеб? - ан. - Дун ккола, валлагь! - ан ахIанила Катицца. - Къуватабги дун, цIакъабги дун, квас чIвалеб гьаркьил магIал rIaдал, гIассиял цабиги дир, дун кколеб хьури-къедги гьечIеб, нуцIцӏа-гъалдуги гьечIеб, тIорахь-рахьги цIакъ бокьулеб, михъалги кьурулел дицца. Мив! Мив! Мив! - абун ццебе чIчӏанила Кету. bi?ungo ?ib quwatab& co nu[alda kwaxarab {asalo ;ara]e 'im heqeRe arab bexe, VerdaSan ]u?Tun, fodob reZun bugo. heb biFun bugo bexe heqeRe baxun wazaraw hiTinaw wasaSda, qebedida. qebediCa baxida hiqanila - bexe, wa bexe, mun vaqgo quwatabi? bugeb, ya;uni dahgoyi?& — an. - dun quwatab bujarabani, hudul qebed, dun 'eda zwarab VoroCa fodob ;elaroan, - ilan abun bugo baxiCa. wasaS Voroda hiqanila - Ver, wa Ver, mun quwatab bugi?& — an. - dun quwatab bujarabani, baquCa biinabilaroan. wasaS baquda hiqanila - baq, mun kinaRdaSago quwatabi? bugeb& - an. - kinaRdaSago dun quwatab bujarabani, naJuCa dun ba{xilaroan. wasaS naJuda hiqanila - naJ, wa naJ, mun SundaSago quwatabi? bugeb& - an. - SundaSago dun quwatab bugebani, fiSinab VadaCa dun bi{a-{oxiRabilaroan. wasaS Vadada hiqanila - Vad, mun SundaSago quwatabi? bugeb& - an. - dun SundaSago quwatab bugebani, rapuCa dun Danibe Jwinaroan. wasaS rapuda hiqanila - biceya, rap, mun bi?ungo quwatabi? Koleb dunyalalda& – yan. - dunyalalda dun bi?un quwatab bugebani, dida Tad, {er biDilaani?& wasaS {arida hiqanila - {er, biceya, bi?ungo quwatab muni? Koleb& - an. - dun bi?ungo quwatab bugebani, dun fiyaCa kwinaroan. wasaS fiyada hiqanila - dir {iriyal xa]abi, dunyalalda bi?ungo quwatal nuDi?& - an. - niD bi?ungo quwatal rugelani, weFaS dore-hanire ]amilaani? niD& - weF, biceya, bi?un dunyalalda quwataw muni?& - abun hiqanila qebediCa. - dun bi?ungo quwataw wujarawani, dir TomoFitaRul zalal fonJoCa kwinaanday& - biceya, funJ, dunyalalda bi?ungo quwatab Do muni? Koleb& - an hiqanila wasaS. - dun bi?ungo quwatab bufebani, katiCa dun kunebanday& wasaS katida ve{anila - biceya, dir iciko, hab dunyalalda bi?un quwatab muni? Koleb& - an. - dun Kola, walah! - an a\anila katiCa. - quwatabgi dun, vaqabgi dun, kwas zwaleb harpil mafal fadal, faSiyal cabigi dir, dun Koleb huri-qedgi hezeb, nuVa-Galdugi hezeb, ToraF-raFgi vaq bopuleb, mi]algi purulel diCa. miw! miw! miw! - abun Cebe Zanila ketu.

  • Хӏамаги бацӏги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ХIамаги бацIги Цо нухалълъ бацIида хIама батун буго цо тоххаб бакIалда. БацI бихьарабго, хIама гьагIдон буго, хIокъ-хIокъ абун, чIчӏечIого рачIчI хьвагIезабун буго, гIундул гъуцIизарун руго. БацIицца гьикъанила: – Дун бихьани, дуцца лъабго батIи-батIияб гIамал гьабула, гьелълъие хIисаб щиб, – ан абун. ХIамицца абун буго: – Дун гьагIдола мун хIинкъилародаян, дуда хIал лъазе теларилан абун. РачIчI хьвагIун, хIокъ-хIокъан абула дур рахIму бегьилародаян абун. БацIицца абун буго: – Дун бихьизегIан гьагIдолеб букIана гури мун? – абун. ХIамицца абун буго: – ХIамаги кIертги бачIине кколаан дида асскIобе, гьезда дунго бугеб бакI лъазе гьагIдолеб букIана, – абун. БацI цIакъ разилъанила, лъабабго чIвазе кигIан лълъикIхха букIина абун кканила. КIартил гьанаде алълъул цIакъго гъира кканила. АсскIоб жибгоги чIчӏун, бацIицца хIама жеги-жеги гьагIдезе тIамунила, ххеххго долцоял тIаде щвезе гъираялда. ХIамил бетIергьан вукIанила хIамаги билун, цIакъ ургъалида тирулев. Гьессда хIамил гьагIдей рагIун буго, гьеб рагIараб бакIалде валагьун векерун вуго. БацIги хIамаги кIиябго батун буго. Воххуцца холаго, кьвагьун буго асс туманкI, чIван буго бацI. БацIил цIцӏокоги бахъун, хIамида гьебги лъун, рокъове вилълъанила бетIергьан.

  • Борохьги церги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Борохьги церги Борохьги Церги гьудулзаби лӏугьун, цо бакӏалда бетӏербахъуда рукӏанила. Кигӏан цӏакъал гьудулзабиян кканиги, Борхьил рекӏелӏ чӏчӏегӏерлъи букӏанила Царадеххун. Цо нухалълъ Царацца абунила: Гьаниб кваназе жоги тӏагӏана нилӏее гьанже, рачӏа нилӏ гьаб ракьги тун, гӏор бахун, дореххун гочинин, - илан. Рачӏа валлагь, - ан абунила Борхьицца, - дидани лълъим ххаризе лъаларохха, дуцца баччизе ккела дун! Баччила гури, баха тӏаде! – янги абун, мугъзада Борохьги рекӏинабун, ххалаго лълъимгун, гӏурул доб рагӏалде щолеб букӏанила Цер, горбода жемунги бачӏун, Борхьицца жиб гъанкъизе ххиял гьабураб меххалълъ. Вахӏ, Борохь, дуцца гьабулеб жо щиб? – ан гьикъанила Царацца, хӏинкъунги лӏугьун. Мун гъанкъизехъин буго дицца, - ян абунила Борхьицца. Гьабго щинаб меххалълъ гьудуллъиги гьабун, нилӏер гьумер цоцада бихьичӏого, хвезе бегьиларо, гьудул. Цо гьанибеххун къулун, дида бадибе балагье, - ян абунила Царацца. Балагьила гури, диеги бокьун буго дур куцалълъухъ балагьизе, - янги абун, Борохь гьелде бадибе къуланила. Гьеб меххалълъ Царацца, хапун ккун, Борхьил бетӏер къунцӏун рехханила. Бехъерхъун босун, гӏурул рагӏалда цӏцӏан битӏизабун Борохьги лъун, Царацца абунила: “Дие гьудул гьале гьадин битӏарабин бокьулеб!” – илан. boroFgi cergi boroFgi cergi hudulRabi `uhun, co bajalda beTerba]uda rujanila. kifan vaqal hudulRabiyan Kanigi, borFil reje` Zefer;i bujanila carade{un. co nu[a' caraCa abunila - hanib kwanaRe Dogi Tafana ni`eye hanDe, raza ni` hab rapgi tun, for ba[un, dore{un goxinin, - ilan. raza walah, - an abunila borFiCa, - didani 'im {ariRe ;alaro{a, duCa baXiRe Kela dun! baXila guri, ba[a Tade! – yangi abun, muGRada boroFgi rejinabun, {alago 'imgun, furul dob rafalde ?oleb bujanila cer, gorboda Demungi bazun, borFiCa Dib GanqiRe {iyal haburab me{a'. wa\, boroF, duCa habuleb Do ?ib& – an hiqanila caraCa, \inqungi `uhun. mun GanqiRe]in bugo diCa, - yan abunila borFiCa. habgo ?inab me{a' hudul;igi habun, ni`er humer cocada biFizogo, [weRe behilaro, hudul. co hanibe{un qulun, dida badibe balahe, - yan abunila caraCa. balahila guri, diyegi bopun bugo dur kuca'u] balahiRe, - yangi abun, boroF helde badibe qulanila. heb me{a' caraCa, [a<un Kun, borFil beTer qunvun re{anila. be]er]un bosun, furul rafalda Van biTiRabun boroFgi ;un, caraCa abunila - “diye hudul hale hadin biTarabin bopuleb!” – ilan.

  • Гӏачивехь | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ГІАЧИВЕХЬ ГьерекӀдерил магӀарда жамагӀаталълъул гӀачиязда вукӀун вугила къватӀиб росулӏа вачӀарав цо мискинав чи. Гьеб заманалда хьиндалазул гӀезегӀанго гӀадамал унел рукӀун руго Азайниб вугев хханассухъе, гьессие сайгъаталълъе батӀи-батӀияб пихъил цӀурал гьагьалги лъун, хӀамулги рачун. Гьев хханассги жив кӀодо гьавун рачӀарал гьел гӀадамазе гьез бачӀаралдаго рекъараб батӀи-батӀияб сайигъат-салам кьун, ритӀулел рукӀанила. Ххассго басрияб, бихъа-тараб ретӀел-хьит, партал гӀемер кьолеб букӀанила гьесс. Цо нухалда дов гӀачивехьассул чӀчӏужуялълъ жиндирго россассда абунила: - Ле, дир бетӀергьанчи, нилӏги хьит-парталалълъул цӀакъго язихъго руго, мунги щай унарев Азайниве хханассухъе, гьессие кинаб букӀаниги сайигъатги босун. Гьенире арал гӀадамалги, партал-хьитги щун, рачӀунел руго, - ян. - Дунни гьениве кутакалда инаан, гьессие босизе жо бугебани, нилӏерго щибго гьечӀо гури, щиб босун дун гьессухъе инев? - ан абунила россасс. - Дицца курак балагьилин, гьедин батани, мун ине къачӀай, — ан абунила чӀчӏужуялълъ. Чанго къоялълъ тӀатӀалаго батӀи-батӀиял гӀадамазе ццебе ккара-ккараб хӀалтӀи гьабизеги хьвадун, цо хӀамида лъезе гьагьал цӀезегӀанассеб курак балагьанила чӀчӏужуялълъ. Цо кӀудияб сапаралълъ къватӀиве вахъунев чи гӀадин, рачІчӏ хӀулараб хӀамида куракул гьагьалги лъун, Азайниб хханассухъе сапарги бухьун, вехьги къватӀиве вахъанила. Россасс гьенисса рачӀунел жалазул пикрабиги гьарулаго, йохха-ххинлъун гьев вачӀинегӀан, гӀачиязде хьвадилей чӀчӏужуги йикӀанила. ГьерекІдерил мегӀерги бегун, эрпелдерил магӀарде щвараб меххалда, вехьассда дандчІванила кутакалда ретӀел-хьиталълъ къачӀарал, месед-гӀарцуцца гвангъизабураб ярагъги барал, гъоркь чӀчӏоларел кьариял чуязда рекӀерал цо чагӀи. ГӀачивехь данде ккейгун, гьез чуял лъалхъизарунила, цинги бищунго ццеве вукӀарасс, нухлулассдеххунги вуссун, гьадин абунила: - Ле, нухлулав, мун щив чи, мун кисса вачӀунев, киве унев чи? - ян. «Мун щив чи?» - абураб суалалълъе «Дун вуго цо чи», ян жавабги кьун, цогидал суалазе жавабги кьечӀого, гьев ине лӏугьанила. Жидее дагьаб курак бичейилан гьаранила гьесс гӏачивехьассда. ГӀачивехьасс абунила: - Валлагь, бичиларо, гьеб буго цӀакъ рикӏкӀадасса бахъараб Азайнисса хханассе сайгъаталълъе босун унеб бугеб жо, - ян. ГӀемер гьарданила гьел гьессда дагьаб жогӀаги бичеян, жидецца дуе дуцца абураб гӀарацги кьелин. Нужецца кигӏан гӀемераб гӀарац кьуниги, бичиларилан вехьассги абунила. - ЛълъикӀ бугохха, а дурго Азайниве, ян абунила гьессда хъахӀаб чода рекӀун вукӀарав чиясс. Гьев чи живго Азайнисса ххан вукӀанила. Жиндирго хӀамаги ццебе къотӀун, вехь Азайниве валагьун вилълъанила. МагӀардаги ссверун, хханги гьессул нукарзабиги вехьассдасса ццере рокъоре щванила. Гьел рукӀанила ххангун цадахъ мугӀрузде рекӀелгъеялълъе тира-ссверизе арал чагӏи. Цо заманалдассан гӀачивехьги щванила Азайниве, хханассул рукъги цӀеххон, гьенив рещтӀанила, гьессие сайигъаталълъе босараб куракги кьунила. Хханассул чагӀаз гьессиеги, хъизамалълъеги бихъа-тараб ретӀел-хьитги гӀарацги кьунила, цинги нахъияб къоялълъ, берцинго, разиго нухда лъунила. ГӀачивехь нухде вахъун гӀемер мехх балелде, нукарзабаздасса цоясс хханассда гьадин абунила: - Гьадав гьоболассе кьурабгӀанассеб жо, гьабго щинаб заманалда дуе нукарлъи гьабулел ругониги, дуцца нижее кьечӀо. Гьеб дир ракӀалълъе цӀакъ захІмалъана. ГьабсагӀаталда доссда ххадувги ун, дуцца доссие кьураб жо бахъизе ракӀалде ккун буго дида, - ян. - ЛълъикӀ буго, - ян абунила жиндирго нукар къварид гьавизе бокьичӀого хханасс, - цинги дуцца доссие ярагъ-квералдалъун щибго жо гьабуге, кӀолеб бугони, ххабар-кӀалалдалъун бахъе. Бан лълъикӀаб ярагъгун, рекӀун чодагун, нукар вахъанила гӀачивехьассда ххадув. Хханассул ракь телалдего, нукар гьессда ххадув гъунила, цинги борххатаб гьаркьидалъун ахӀанила гӀачивехьассде: - Ле, нухлулав, мун чӀчӏа, хханасс дун витӀун вуго мун нахъвуссинавун жиндихъего вачейилан! - ян. Щибизедай дун гьессие абун, батӀи-батӀиял пикрабиги гьарулаго, вехь цӀакъго ургъалилӏе кканила. Гьев дагьавги захІматаб хӀалалде ккезавизе къваригӀун, тӀаде щварав нукарасс гьессда абунила: - Дицца кьураб лъабго суалалълъе дуцца битӀун жаваб кьуни, дицца мун нахъвуссинавун вачинчӀого тела, - ян. ЛълъикӀ бугилан вехьги разилъанила. - Кье дурго суалал, дицца кІвараб куцалда дур гьел суалазе жаваб кьела, - ян абунила вехьасс. - Гьаб дунялалълъул бакьулӏ бакӀ киб бугеб? - ан гьикъанила нукарасс гьессда тӀоццебе. - Гьаб дир чӀчӏегӀераб хӀамил щинкӀил чӀчӏараб бакӀалда гъоркь буго, гьелда божиларин ккани, борце дуццаго, - ян абунила гӀачивехьасс нукарассда. Бегьанила вехьассул гьеб жаваб нукарассе. - Гьадаб зодоб чан цІцӏва бугеб? — ан гьикъанила кӀиабизеги нукарасс гӀачивехьассда. - Гьаб дир чӏчӏегӏераб хӏамида чан рас батаниги, гьедигӀан цІцӏва буго зодоб, гьелда дур щаклъи кколеб батани, рикІкӀе дуццаго, ян жаваб кьунила гьелда дандеги гӏачивехьасс. Бегьанила гьеб жавабги нукарассе. - Гьанже дуцца бице бищун ясазе вокьулев чи щивали? - Ян гьикъанила лъабабизеги нукарасс. - Гьеб дуцца ретӀун бугеб ретӀелги, бан бугеб ярагъги, гъоркь рекӀун бугеб чуги дихъе кье, - ян абунила, ххал хъубав нукарассда ракӀалда бугеб жо бичӏчӀизе лӏугьарав гӀачивехьасс, - гьебмеххалда дицца бихьизабила дуда ясазе вокьулев чи кинав вукӀуневали. Хисанила гьез ретӀелги, банила гӀачивехьасс нукарассул ярагъги, ваханила гьев нукарассул чодеги, цинги «Ясазе гьадинав чи вокьула!» янги ахӀун, кьабун чода цІцӏалгун, «Дуе къо-мехх лълъикӏ!» - илан нукарассдаги абун, бухъизабунила гӀачивехьасс рокъобе. Вехьассул хӀул-хӀулараб чӀчӏегІераб хӀамаги ццебе къотӀун, хханассухъе тӀадвуссун нукарги анила. ГӀачивехьассулги жиндиргоги ккараб гьесс хханассда бицанила. Гьебмеххалда хханасс гьессда абунила: - ЧӀалгӀаде гуреб досс, мун щиван гьикъараб меххалълъ, дун цо чи вугилан доб магӀардаго абун букӀараб. Долълъул магӀна букӀана, дун вуго цо чияссда данде чи абураб магӀна, - ян. faxiweF herejderil mafarda Damafata'ul faxiyaRda wujun wugila qwaTib rosu`a wazaraw co miskinaw xi. heb zamanalda FindalaRul feRefango fadamal unel rujun rugo aRaynib wugew {anaSu]e, heSiye sayGata'e baTi-baTiyab <i]il cural hahalgi ;un, \amulgi raxun. hew {anaSgi Diw jodo hawun razaral hel fadamaRe heR bazaraldago reqarab baTi-baTiyab sayiGat-salam pun, riTulel rujanila. {aSgo basriyab, bi]a-tarab reTel-Fit, <artal femer poleb bujanila heS. co nu[alda dow faxiweFaSul ZuDuya' Dindirgo roSaSda abunila - le, dir beTerhanxi, ni`gi Fit-<artala'ul vaqgo yaRi]go rugo, mungi ?ay unarew aRayniwe {anaSu]e, heSiye kinab bujanigi sayiGatgi bosun. henire aral fadamalgi, <artal-Fitgi ?un, razunel rugo, - yan. - dunni heniwe kutakalda inaan, heSiye bosiRe Do bugebani, ni`ergo ?ibgo hezo guri, ?ib bosun dun heSu]e inew& - an abunila roSaS. - diCa kurak balahilin, hedin batani, mun ine qazay, — an abunila ZuDuya'. xango qoya' TaTalago baTi-baTiyal fadamaRe Cebe Kara-Karab \alTi habiRegi Fwadun, co \amida ;eRe hahal veRefanaSeb kurak balahanila ZuDuya'. co judiyab sapara' qwaTiwe wa]unew xi fadin, raZ \ularab \amida kurakul hahalgi ;un, aRaynib {anaSu]e sa<argi buFun, weFgi qwaTiwe wa]anila. roSaS heniSa razunel DalaRul <ikrabigi harulago, yo{a-{in;un hew wazinefan, faxiyaRde Fwadiley ZuDugi yijanila. herejderil mefergi begun, er<elderil mafarde ?warab me{alda, weFaSda dandzwanila kutakalda reTel-Fita' qazaral, mesed-farcuCa gwanGiRaburab yaraGgi baral, Gorp Zolarel pariyal xuyaRda rejeral co xafi. faxiweF dande Keygun, heR xuyal ;al]iRarunila, cingi bi?ungo Cewe wujaraS, nu[lulaSde{ungi wuSun, hadin abunila - le, nu[lulaw, mun ?iw xi, mun kiSa wazunew, kiwe unew xi& - yan. «mun ?iw xi&» - aburab suala'e «dun wugo co xi», yan Dawabgi pun, cogidal sualaRe Dawabgi pezogo, hew ine `uhanila. Dideye dahab kurak bixeyilan haranila heS faxiweFaSda. faxiweFaS abunila - walah, bixilaro, heb bugo vaq riJadaSa ba]arab aRayniSa {anaSe sayGata'e bosun uneb bugeb Do, - yan. femer hardanila hel heSda dahab Dofagi bixeyan, DideCa duye duCa aburab faracgi pelin. nuDeCa kifan femerab farac punigi, bixilarilan weFaSgi abunila. - 'ij bugo{a, a durgo aRayniwe, yan abunila heSda ]a\ab xoda rejun wujaraw xiyaS. hew xi Diwgo aRayniSa {an wujanila. Dindirgo \amagi Cebe qoTun, weF aRayniwe walahun wi'anila. mafardagi Swerun, {angi heSul nukarRabigi weFaSdaSa Cere roqore ?wanila. hel rujanila {angun cada] mufruRde rejelGeya'e tira-SweriRe aral xafi. co RamanaldaSan faxiweFgi ?wanila aRayniwe, {anaSul ruqgi ve{on, heniw re?Tanila, heSiye sayiGata'e bosarab kurakgi punila. {anaSul xafaR heSiyegi, ]iRama'egi bi]a-tarab reTel-Fitgi faracgi punila, cingi na]iyab qoya', bercingo, raRigo nu[da ;unila. faxiweF nu[de wa]un femer me{ balelde, nukarRabaRdaSa coyaS {anaSda hadin abunila - hadaw hobolaSe purabfanaSeb Do, habgo ?inab Ramanalda duye nukar;i habulel rugonigi, duCa niDeye pezo. heb dir raja'e vaq Ra\ma;ana. habsafatalda doSda {aduwgi un, duCa doSiye purab Do ba]iRe rajalde Kun bugo dida, - yan. - 'ij bugo, - yan abunila Dindirgo nukar qwarid hawiRe bopizogo {anaS, - cingi duCa doSiye yaraG-kweralda;un ?ibgo Do habuge, joleb bugoni, {abar-jalalda;un ba]e. ban 'ijab yaraGgun, rejun xodagun, nukar wa]anila faxiweFaSda {aduw. {anaSul rap telaldego, nukar heSda {aduw Gunila, cingi bor{atab harpida;un a\anila faxiweFaSde - le, nu[lulaw, mun Za, {anaS dun wiTun wugo mun na]wuSinawun Dindi]ego waxeyilan! - yan. ?ibiReday dun heSiye abun, baTi-baTiyal <ikrabigi harulago, weF vaqgo urGali`e Kanila. hew dahawgi Ra\matab \alalde KeRawiRe qwarifun, Tade ?waraw nukaraS heSda abunila - diCa purab ;abgo suala'e duCa biTun Dawab puni, diCa mun na]wuSinawun waxinzogo tela, - yan. 'ij bugilan weFgi raRi;anila. - pe durgo sualal, diCa jwarab kucalda dur hel sualaRe Dawab pela, - yan abunila weFaS. - hab dunyala'ul bapu` baj kib bugeb& - an hiqanila nukaraS heSda ToCebe. - hab dir Zeferab \amil ?injil Zarab bajalda Gorp bugo, helda boDilarin Kani, borce duCago, - yan abunila faxiweFaS nukaraSda. behanila weFaSul heb Dawab nukaraSe. - hadab Rodob xan Vwa bugeb& — an hiqanila jiabiRegi nukaraS faxiweFaSda. - hab dir Zeferab \amida xan ras batanigi, hedifan Vwa bugo Rodob, helda dur ?ak;i Koleb batani, riJe duCago, yan Dawab punila helda dandegi faxiweFaS. behanila heb Dawabgi nukaraSe. - hanDe duCa bice bi?un yasaRe wopulew xi ?iwali& - yan hiqanila ;ab~abiRegi nukaraS. - heb duCa reTun bugeb reTelgi, ban bugeb yaraGgi, Gorp rejun bugeb xugi di]e pe, - yan abunila, {al ]ubaw nukaraSda rajalda bugeb Do biZiRe `uharaw faxiweFaS, - hebme{alda diCa biFiRabila duda yasaRe wopulew xi kinaw wujunewali. [isanila heR reTelgi, banila faxiweFaS nukaraSul yaraGgi, wa[anila hew nukaraSul xodegi, cingi «yasaRe hadinaw xi wopula!» yangi a\un, pabun xoda Valgun, «duye qo-me{ 'ij!» - ilan nukaraSdagi abun, bu]iRabunila faxiweFaS roqobe. weFaSul \ul-\ularab Zeferab \amagi Cebe qoTun, {anaSu]e TadwuSun nukargi anila. faxiweFaSulgi Dindirgogi Karab heS {anaSda bicanila. hebme{alda {anaS heSda abunila - zalfade gureb doS, mun ?iwan hiqarab me{a', dun co xi wugilan dob mafardago abun bujarab. Do'ul mafna bujana, dun wugo co xiyaSda dande xi aburab mafna, - yan.

  • Дир санал тӏикъваялда | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ДИР САНАЛ ТӏИКЪВАЯЛДА ХЪВАН РУГО БукIанила, букIинчIила цо Чуги, цо Бацӏги, цо Церги. Гьел лъабазго хIукму гьабуцила цадахъ гьудул-гьалмагълъиялда гIумру гьабизе. Гьединаб къагIидаялда гьел цо лълъикIалан заманалълъ цадахъ рукIанила. Цо заманалдассан тIаде щванила квачараб ххасел. Квине жоялълъул рахъалълъ къварилъи кканила гьезие. Гьебмеххалълъ гьезда гьоркьоб зигара бакканила гьадин ракъуцца хвезе рукIине бегьуларин, цо щибниги ургъизе ккелин. Царацца абунила рачIайин нилӏеда гьоркьосса гIумруялълъул рахъалълъ бищунго гьитIинаб кинаб батаниги, гьеле гьеб квине бугин ххутIаразилан. Гьелда БацIги разилъанила. Царада гьикъанила мун кидайин гьабурабилан. Гьелълъ абунила: - Дун НухI аварагассул заманалдаго гьабураб буго, - ян. БацIида гьикъанила мун кида гьабурабилан. Гьелълъги абунила: - Цер гьабураб меххалълъ, дун кIудияб гIураб, гIолохъанаб бацl букIана, - ян. Чода гьикъанила мун кида гьабурабилан. Чода бичӏчӏанила, Бацlги Церги рекъон, жиндие хIила ургъулел букIин. Гьелълъ абунила: - Дида дунго гьабураб заман лъаларо, эбел-инссуццани дир кваранаб боххалълъул тIикъваялда хъван тун буго дун гьабураб сон. Нужеего гьеб лъазе бокьани, гьенире раккизе бегьула, - ян. БацIицца абунила Царада: - Билълъа до балагье, Цер, чан сон бугеб нилӏер гьалмагъалълъулали, - ян. Царада гьебсагIат бичӏчӏанила гьелълъул ккезе бегьулеб жо, цинги гьелълъ абунила жиб цIцӏалараб гьечIин, жинда цIцӏализе, хъвазе лъаларин, мунго балагьейилан. Гьебмеххалълъ, кIанцIун тIаде бахъун, Бацl лӏугьанила Чобул тIикъваялда хъвараб жо щибдай бугоян балагьизе. Лълъикӏ ссанагIаталда Бацl ккараб меххалълъ, лълъикIаб хIалалда борххун, бан биччан танила Чоцца Бацlил ботIролӏ мал. Басрияб хъабахъ гIадин, бихъ-бихъун 6етIергун, гIодоб речlчlун, БацIги хванила, гьеб бихьараб Цараццаги гьеб рахъ-мухъго танила. dir sanal Tiqwayalda ]wan rugo bujanila, bujinzila co xugi, co bavgi, co cergi. hel ;abaRgo \ukmu habunila cada] hudul-halmaG;iyalda fumru habiRe. hedinab qafidayalda hel co 'ijalan Ramana' cada] rujanila. co RamanaldaSan Tade ?wanila kwaxarab {asel. kwine Doya'ul ra]a' qwari;i Kanila heRiye. hebme{a' heRda horpob Rigara baKanila hadin raquCa [weRe rujine behularin, co ?ibnigi urGiRe Kelin. caraCa abunila razayin ni`eda horpoSa fumruya'ul ra]a' bi?ungo hiTinab kinab batanigi, hele heb kwine bugin {uTaraRilan. helda bavgi raRi;anila. carada hiqanila mun kidayin haburabilan. he' abunila - dun nu\ awaragaSul Ramanaldago haburab bugo, - yan. bavida hiqanila mun kida haburabilan. he'gi abunila - cer haburab me{a', dun judiyab furab, folo]anab bav bujana, - yan. xoda hiqanila mun kida haburabilan. xoda biZanila, bavgi cergi reqon, Dindiye \ila urGulel rujin. he' abunila - dida dungo haburab Raman ;alaro, ebel-inSuCani dir kwaranab bo{a'ul Tiqwayalda ]wan tun bugo dun haburab son. nuDeyego heb ;aRe bopani, henire raKiRe behula, - yan. baviCa abunila carada - bi'a co balahe, cer, xan son bugeb ni`er halmaGa'ulali, - yan. carada hebsafat biZanila he'ul KeRe behuleb Do, cingi he' abunila Dib Valarab hezin, Dinda ValiRe, ]waRe ;alarin, mungo balaheyilan. hebme{a', janvun Tade ba]un, bav `uhanila xodul Tiqwayalda ]warab Do ?ibday bugoyan balahiRe. 'ij Sanafatalda bav Karab me{a', 'ijab \alalda bor{un, ban biXan tanila xoCa bavil boTro` mal. basriyab ]aba] fadin, bi]-bi]un beTergun, fodob reZun, bavgi [wanila, heb biFarab caraCagi heb ra]-mu]go tanila.

  • Чӏухӏараб гӏункӏкӏ | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Чӏухӏараб гӏункӏкӏ Гьабихъ Гӏункӏкӏ, кетуги гьечӏого, хӏинкъиги гьечӏого, цӏакъ аваданго, ракӏ кӏодого, ццулъун, чӏухӏун букӏун буго. Васассе лълъади бищунго бергьараб жоялълъул гурони ячинаро абун, гьедун буго гьеб. Гьелълъ пикру гьабун буго бакъалдасса бергьараб жо гьечӏо абун. Бакъухъеги ун, Гӏонкӏкӏоцца жиндирго мурад бицун буго. Бакъуцца абун буго, дидасса Накӏкӏ бергьараб буго, гьелълъ дун, ццебеги чӏчӏун, къватӏибе баккизе биччалароян. Ун буго Накӏкӏухъе. Накӏкӏуцца абун буго, дидасса Гьури бергьуна, Гьороцца добе хъамун, гьанибе хъамун, бокьаралълъуб чӏчӏезе толаро дунилан. Ун буго Гьорохъе. Гьороцца абун буго, дидасса Мегӏер бергьунаян. Эб ццебе ккани, дие бокьаралълъубе ине нух щолароян. Ун буго Мегӏерулълъухъе. Мегӏералълъ абун буго, дидасса Гӏункӏкӏ бергьуна, гьелълъ гъоркьан борлӏун, тӏассан борлӏун, аххалъи борлӏун, бетӏер борлӏун, хӏалхьи биччаларого дун унтун бугин. Элълъие гьабизе кӏолеб жо гьечӏого, малълъ къосун буго дун. Боххуцца холаго, бищун бергьараб жо Гӏункӏкӏ букӏун буго абун, Гӏонкӏкӏол ясги ячун, бахӏарал гьарун руго. zu\arab funJ habi] funJ, ketugi hezogo, \inqigi hezogo, vaq awadango, raj jodogo, Cu;un, zu\un bujun bugo. wasaSe 'adi bi?ungo berharab Doya'ul guroni yaxinaro abun, hedun bugo heb. he' <ikru habun bugo baqaldaSa berharab Do hezo abun. baqu]egi un, fonJoCa Dindirgo murad bicun bugo. baquCa abun bugo, didaSa naJ berharab bugo, he' dun, Cebegi Zun, qwaTibe baKiRe biXalaroyan. un bugo naJu]e. naJuCa abun bugo, didaSa huri berhuna, horoCa dobe ]amun, hanibe ]amun, bopara'ub ZeRe tolaro dunilan. un bugo horo]e. horoCa abun bugo, didaSa mefer berhunayan. eb Cebe Kani, diye bopara'ube ine nu[ ?olaroyan. un bugo meferu'u]e. mefera' abun bugo, didaSa funJ berhuna, he' Gorpan bor`un, TaSan bor`un, a{a;i bor`un, beTer bor`un, \alFi biXalarogo dun untun bugin. e'iye habiRe joleb Do hezogo, ma' qosun bugo dun. bo{uCa [olago, bi?un berharab Do funJ bujun bugo abun, fonJol yasgi yaxun, ba\aral harun rugo.

  • Царал бохх | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Царал бохх Цер битIун буго рохьобе цIулада ххадуб. Рохьобе инаго царал бохх хIарщулӏ къан буго. Царада гъотIода мокъокъ бихьун буго. Цер кIалъан буго мокъокъида дир бохх бацIцIизе гъотIодасса цо тIамах реххеян. – Реххиларо, – ян абун буго мокъокъицца. Гьеб меххалълъ цер кIалъан буго гъедуялда: – Гъеду, ва гъеду, дицца гьарана мокъокъида гъотIодасса дие цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъолълъ реххичIо; реххе дие цо тIамах бохх бацIцIизе. – Реххиларо, – ян абун буго гъедуялълъ. Ххадуб цер кIалъан буго гугоялда. – Гуго, ва гуго, дицца гьарана мокъокъида дие гьотIодасса цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъолълъ реххичIо, дицца гьарана гъедуялда гъолълъги реххичIо; дуццагIаги реххе дие цо тIамах бохх бацIцIизе. – Реххиларо, – ян абун буго гугоялълъ. Цер кIалъан буго цIцӏумалда. – ЦIцӏум, ва цIцӏум, дицца гьарана мокъокъида дие гъотIодасса цо тIамах реххеян, гъолълъ реххичIо, дицца гьарана гъедуялда дие цо тIамах реххеян гъотIодасса, гъолълъги реххичIо, дицца гьарана гугоялда дие цо тIамах реххеян гъотIодасса, гъолълъги реххичIо. ДуццагIаги реххе дие гъотIодасса цо тIамах дир бохх бацIцIизе. – Реххиларо, – ян абун буго цIцӏумалълъ. Аххирги цер кIалъан буго цIцӏунцIцӏраялда. – ЦIцӏунцIра, цIцӏунцIра, дицца гьарана мокъокъида, гъедуялда, гугоялда, цIцӏумида дие гъотIодасса цо тIамах реххеян бохх бацIцIизе, гъоз реххичIо. ДуццагIаги реххе дие тIамах. ЦIцӏунцIцӏраялъ реххун буго царае бохх бацIцIизе тIамах. Цер, бацIцIун боххгун, ун буго рокъобе.

  • Бихьараб щинаб | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    БИХЬАРАБ ЩИНАБ БИЦИНЕ ККОЛАРО Цо улкаялда вукӀун вуго цӀакъ бечедав ххан. Гьессул бетӀералда букӀун буго буртӀинкилищ гӀанассеб лӏар. Гьеб лӏар гьессда жиндагоги гьессул мегеж-бетӀер кӀкІвалев цо ххассав чияссдаги гурони нахъиязда лъалеб букӀун гьечӀо. Цо заманалдассан хун вуго гьессул мегеж-бетӀер кӀкІвалев чи. Гьебмеххалда хханассде кӀудияб ургъел ккун буго. Мегеж-бетӀер кӀкІвазе цоги цӀцӏодорав гӀадав чи валагьун вуго гьесс. Хханасс гьессда абун буго: - Дуе дицца гӀурабгӀан гӀарацги кьела, вукӀине лълъикӏаб рукъги кьела, дуццани гьаб дир бетӀералда бугеб лӏар цоги чияссда бицани, дицца мун чІвазе вуго, - ян. Гьев чиясс рагӀи кьун буго лълъиданиги гьеб балъголъи къватӀиб жинцца бицинарилан. Гьеб къоялдассани нахъе гьеб мегеж-бетӀер кӀкІвалев чи лъалаго тӀад вакъвазе лӏугьун вуго. Гьессие бокьун буго лълъида букӀаниги хханассул бетӀералда лӏар букӀин бицине. Бицани, чІвалин абураб жоялдассаги хӀинкъун, бицинчӀого яхІ гьабизеги кӀоларого, тату хун вукӀун вуго гьев чи. Аххиралдаги гьев цо къоялда магъилӏе къватӀиве вахъун вуго, цо бахараб муцӀцӏи бугеб бакӀалде жанивеги ун, гьев чиясс лъабго нухалда гьадин абун буго жинццаго жиндаго: «Нилӏер хханассул бетӀералда буртӀинкилищ гӀанассеб лӏар буго», — ян. Гьебмеххалда гьев чи цо унти тӀасса араб гӀадин лӏугьун вуго, цинги тӀадвуссун рокъове вачӀун вуго. Гьеб муцӏцӏи бугеб бакӏалда ссверухъ гӀи кваназабулев вукӀун вуго цо вехь. ЧӀалгӀунги вукӀун, гьев вехьасс, муцӀцӏидулӏа къотӀун, жиндиего цо лалу гьабун буго, гьебги пузе байбихьун вуго. Кинаб бакъан лалуялдасса бачӏаниги, гьелълъ абизе лӏугьун буго: «Нилӏер хханассул ботІрода буртӀинкилищ гӀанаб лӏар буго», - ян. Вехьасс гьелда цӀакъ гӀажаиблъи гьабун буго. Ссверухъ ругел гӀадамаздаги рагӀун буго гьеб ххабар. Аххиралда гьеб ххабар живго хханассдаги рагӀун буго. Хханассул кутакалда ццин бахъун буго, цинги жиндирго мегеж-бетІер кІкІвалев чиги асскӀове ахӀун, гьессда лъазабун буго: - Дуцца дир суалалълъе гьересси бицани, дицца мун чӏвазе вуго. БитӀараб бицани, рахІму гьабун, тезеги бегьула. Дуцца дида бице дир бетӀералда лӏар бугилан дуцца лълъиданиги абунищ, абичӀищ? - ан. Хханассе гьесс жаваб кьун буго: - Дур бетӀерчӀахъад, дуцца цӀакъго кьваризабун, къватӀиб бицани, чӀвалин абун, лъазабун букӀинчӀебани, дур бетӀералда лӏар букӀиналълъул дицца цо гьедигӀан кІвар гьабичӀого тезеги бегьулаан. Дуццани, лълъидаго бицунгеян, кӀудияб хӀинкъиги кьун, лъазабуралдасса ххадуб, дида битӀахъе унти ккана. Аххиралдаги, тату хварав чи дун цо къоялълъ магъилӏе ана, цинги бахараб муцӀцӏи бугеб бакӀалде жанивеги лӏугьун, лъабго нухалда бигьа гьабун диццаго дидаго абуна дур бетӀералда лӏар бугилан, - ан. Ххалкъалда жиндир балъголъиги тӀатиндал, битӀахъе мукӀурлъун гьев чияссги бициндал, хханасс гьев чІвачӏого тун вуго. biFarab ?inab bicine Kolaro co ulkayalda wujun wugo vaq bexedaw {an. heSul beTeralda bujun bugo burTinkili? fanaSeb `ar. heb `ar heSda Dindagogi heSul megeD-beTer Jwalew co {aSaw xiyaSdagi guroni na]iyaRda ;aleb bujun hezo. co RamanaldaSan hun wugo heSul megeD-beTer Jwalew xi. hebme{alda {anaSde judiyab urGelKun bugo. megeD-beTer JwaRe cogi Vodoraw fadaw xi walahun wugo heS. {anaS heSda abun bugo - duye diCa furabfan faracgi pela, wujine 'ijab ruqgi pela, duCani hab dir beTeralda bugeb `ar cogi xiyaSda bicani, diCa mun zwaRe wugo, - yan. hew xiyaS rafi pun bugo 'idanigi heb ba;go;i qwaTib DinCa bicinarilan. heb qoyaldaSani na]e heb megeD-beTer Jwalew xi ;alago Tad waqwaRe `uhun wugo. heSiye bopun bugo 'ida bujanigi {anaSul beTeralda `ar bujin bicine. bicani, zwalin aburab DoyaldaSagi \inqun, bicinzogo ya\ habiRegi jolarogo, tatu [un wujun wugo hew xi. a{iraldagi hew co qoyalda maGi`e qwaTiwe wa]un wugo, co ba[arab muVi bugeb bajalde Daniwegi un, hew xiyaS ;abgo nu[alda hadin abun bugo DinCago Dindago - «ni`er {anaSul beTeralda burTinkili? fanaSeb `ar bugo», — yan. hebme{alda hew xi co unti TaSa arab fadin `uhun wugo, cingi TadwuSun roqowe wazun wugo. heb muVi bugeb bajalda Sweru] fi kwanaRabulew wujun wugo co weF. zalfungi wujun, hew weFaS, muVidu`a qoTun, Dindiyego co lalu habun bugo, hebgi <uRe baybiFun wugo. Kinab bawan laluyaldaSa bazanigi, he' abiRe `uhun bugo - «ni`er {anaSul boTroda burTinkili? fanab `ar bugo», - yan. weFaS helda vaq faDaib;i habun bugo. Sweru] rugel fadamaRdagi rafun bugo heb {abar. a{iralda heb {abar Diwgo {anaSdagi rafun bugo. {anaSul kutakalda Cin ba]un bugo, cingi Dindirgo megeD-beTer Jwalew xigi aSjowe a\un, heSda ;aRabun bugo - duCa dir suala'e hereSi bicani, diCa mun zwaRe wugo. biTarab bicani, ra\mu habun, teRegi behula. duCa dida bice dir beTeralda `ar bugilan duCa 'idanigi abuni?, abizi? - an. {anaSe heS Dawab pun bugo - dur beTerza]ad, duCa vaqgo pwariRabun, qwaTib bicani, zwalin abun, ;aRabun bujinzebani, dur beTeralda `ar bujina'ul diCa co hedifan jwar habizogo teRegi behulaan. duCani, 'idago bicungeyan, judiyab \inqigi pun, ;aRaburaldaSa {adub, dida biTa]e unti Kana. a{iraldagi, tatu [waraw xi dun co qoya' maGi`e ana, cingi ba[arab muVi bugeb bajalde Daniwegi `uhun, ;abgo nu[alda biha habun diCago didago abuna dur beTeralda `ar bugilan, - an. {alqalda Dindir ba;go;igi Tatindal, biTa]e mujur;un hew xiyaSgi bicindal, {anaS hew zwazogo tun wugo.

  • Бацӏги гьойги | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    БАЦІГИ ГЬОЙГИ Гӏи букӀанила рехъада кваналеб. БацӀида гьеб кидаго бихьулеб букӀанила. Гьой хӀапун, туманкІгун вехь жуван, БацӀие жо щвезе толеб букӀинчӏила. БацӀицца Царадеххун ургъел бикьун буго, гьадин бугин, гойцца щибго жо щвезе толеб гьечӀин, дие щвани, хӀетӏ-бетӀер, чехь-бакьгӀаги дуеги букӀинарищхха, щибдай гъабилаян абун. Цер Гьойде асскӀобе ун буго, гьелълъулгун гьудул-гьалмагълъи гьабун буго. Гьой цӀакъ рахӀат гьечӀого, хӀапдон, добе бортун, хӀапдон, гьанибе бортун, батун буго. Царацца гьелда абунила: - Гьаб щиб хӀапдей, рахӀат гьечӀеб гӀумру буго дур, - ан. Гьелде данде Гьойцца абунила: - БацӀидасса хӀинкъун хӀапдола дун. БацӀихъе щвани, гьелълъ дунги чІвала, гӀиги чІвала. Вехь хӀадурго вукӀине, Дунги хӀапдола, - ян. Царацца абунила: - БацӀилгун божа-рокьи гьабулареб щай дуцца, жеги мун нижер ххан абун тани, хханасс улка цӀунулеб гӀадин, гьелълъ нужги цӀунила. Божуда асскӀоб ххиянат гьечӀо, гьабсагӀатги дир тӀанчӀи гьелда асскӀор руго. Божи гьечӀого, гьедин хӀапдолеб бугони, хӀал кІвараб гьелълъги гьабила, гьелълъ гуребги гьабила, - ян. Гьелълъул гӀакълу битӀун бихьун, Гьой разилъун буго. Инеги ун, Царацца БацІ къотӀи-къай гьабизе бачун бачӀун буго. Царацца абунила гьелда: Мун хханлъунги тун, жибги гӏиги дур абун чӏчӏезе бокьун буго Гьоялълъе. Квешаб-лълъикӏаб заралалдасса дуцца цӏуниларищхха гьел, - ан. Бацӏицца жаваб къунила: - Дун бацӏазул ххан-пачахӏ буго, дир изну гьечӏого, гьезда щибго жо гьабизе кӏоларо. Дун хханлъун тани, гьел дир ккола, хханасс улка цӏунула, диццаги цӏунула, диццаги дирго гӏиги вехьги цӏуничӏого гӏелищ. Гьеб кӏудияб аманат божуда асскӏоб дун тоххлъизе бегьилищ? Гьойни божи гьечӏого хӏапдезе бегьиларо, - ян. Гьойцца рагӏи кьун буго хӏапделаро абун. Бацӏги Гьойги цадахъ хьвадизе лӏугьанила... Цо къоялълъ ракӏалдаго гьечӏого, цо жоги бихьун, Гьой хӏапдон буго. Гьебмеххалда Бацӏицца абунила гьелда: - Дур рагӏиги хванахха, дуда божиги хванахха, - ян. Гьойцца абунила: - Тӏокӏаб хӏапиларо, ракӏалдаго гьечӏого, хӏапун ккана, - ян Нахъиссел къояз Гьойда божун, вехьги вегун, Гьойги гӏиги ккун буго цо тоххаб бакӏалде. Гьениб Бацӏицца абунила: - Сон-ццерекъад дурги хвана рагӏи, божи хун, мун хӏапдана, жакъа дирги хвезе бегьила, - ян. Гьебги абун, речӏчӏун Бацӏицца цин Гьой чӏванила, цинги цо течӏого гӏиги гъуранила. Вахъун валагьаравго, вехьассда бихьун бугила гъурун бараб гӏиги, чӏван реххараб Гьойги. Тушманассда божун, тохх рукӏине бегьунгутӏи, кватӏун бугониги, баянлъанила гьассие. bavgi hoygi fi bujanila re]ada kwanaleb. bavida heb kidago biFuleb bujanila. hoy \a<un, tumanjgun weF Duwan, baviye Do ?weRe toleb bujinzila. baviCa carade{un urGel bipun bugo, hadin bugin, goyCa ?ibgo Do ?weRe toleb hezin, diye ?wani, \eT-beTer, xeF-bapfagi duyegi bujinari?{a, ?ibday habilayan abun. cer hoyde aSjobe un bugo, he'ulgun hudul-halmaG;i habun bugo. hoy vaq ra\at hezogo, \a<don, dobe bortun, \a<don, hanibe bortun, batun bugo. caraCa helda abunila - hab ?ib \a<dey, ra\at hezeb fumru bugo dur, - an. helde dande hoyCa abunila - bavidaSa \inqun \a<dola dun. bavi]e ?wani, he' dungi zwala, figi zwala. weF \adurgo wujine, dungi \a<dola, - yan. caraCa abunila - bavilgun boDa-ropi habulareb ?ay duCa, Degi mun niDer {an abun tani, {anaS ulka vunuleb fadin, he' nuDgi vunila. boDuda aSjob {iyanat hezo, habsafatgi dir Tanzi helda aSjor rugo. boDi hezogo, hedin \a<doleb bugoni, \al jwarab he'gi habila, he' gurebgi habila, - yan. he'ul faqlu biTun biFun, hoy raRi;un bugo. inegi un, caraCa bav qoTi-qay habiRe baxun bazun bugo. caraCa abunila helda mun {an;ungi tun, Dibgi figi dur abun ZeRe bopun bugo hoya'e. kwe/ab-'ijab RaralaldaSa duCa vunilari?{a hel, - an. baviCa Dawab qunila - dun bavaRul {an-<axa\ bugo, dir iRnu hezogo, heRda ?ibgo Do habiRe jolaro. dun {an;un tani, hel dir Kola, {anaS ulka vunula, diCagi vunula, diCagi dirgo figi weFgi vunizogo feli?. heb judiyab amanat boDuda aSjob dun to{;iRe behili?& hoyni boDi hezogo \a<deRe behilaro, - yan. hoyCa rafi pun bugo \a<delaro abun. bavgi hoygi cada] FwadiRe `uhanila... co qoya; rajaldago hezogo, co Dogi biFun, hoy \a<don bugo. hebme{alda baviCa abunila helda - dur rafigi [wana{a, duda boDigi [wana{a, - yan. hoyCa abunila - Tojab \a<ilaro, rajaldago hezogo, \a<un Kana, - yan na]iSel qoyaR hoyda boDun, weFgi wegun, hoygi figi Kun bugo co to{ab bajalde. henib baviCa abunila - son-Cereqad durgi [wana rafi, boDi [un, mun \a<dana, Daqa dirgi [weRe behila, - yan. hebgi abun, reZun baviCa cin hoy zwanila, cingi co tezogo figi Guranila. wa]un walaharawgo, weFaSda biFun bugila Gurun barab figi, zwan re{arab hoygi. tu/manaSda boDun, to{ rujine behunguTi, kwaTun bugonigi, bayan;anila haSiye.

bottom of page