
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Результаты поиска
1985 results found with an empty search
- xx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Лълъ : Лълъадал берищ, рокьол гIусищ? Гьал рагIаби абуралила хIара чIварай ралила лълъадул угьи-зигараялде бер-ракI щвечIеб щайтIаналълъ. Кици тIамула бералълъулги гIусалълъулгигIан захIматаб унти гьечIебилан абураб магIнаялда. Лълъадал къатIраялълъги гамачI борлIулеб, цIадул хIенехIалълъги дунял бухIулеб. Лълъадаццаги жиндиего нух бахъула. Лълъади гьечIев россги росс гьечIей чIчIужуги – чIобогояб рукъ. Лълъади квешассул гIумру гIазабалда гирула. Лълъади лълъикIав лълъикI вуго, лълъади квешав квеш вуго. Кици гIунтIизабула Шамилил наиб Инквачилассде. Гьев цо росулIе щвараб меххалълъ, гIадамал гьессда гьикъарун руго: «Росу-жамагIат кин бугеб?» – ан. Гьесс жаваб кьун буго: «Лълъади квешав квеш вуго, лълъади лълъикIав лълъикI вуго», - ян. Лълъади чиярай лълъикIайлъун йихьулейила, чу нилIерабго цIакъаблъун бихьулебила. Лълъади ячине анцIгоявгун ургъе, йиччазе нусгоявгун ургъе. Лълъадигун вагъуларев лълъикьаниги къоларев. Лълъадул букIунебила букарулеб бакI, буххичIони букари къотIулареб. Лълъадул гIагарав чияссул яс васассе ячунге. Лълъадул ригьнивги вукIунге, лълъадул гIакаги хьихьуге. Лълъадулгун кколеб къеццалдасса тIагIам гьечIеб дандежо букIунареб. Лълъеда бараб полоп гIадаб жойила росс-лълъадиялда гьоркьоб кколеб кьал. Лълъеда бахъун накъищ чIчIолареб. Лълъеда тIад хъвадарун, ххатI лIугьунареб. Лълъеда хIал барасс бахъухъ цIцIикIкIун кваналеб, хIохь бахъарасс хIалтIи цIцIикIкIун гьабулеб. Дибирасс къулгьудалълъе цадахъ васги вачун вукIун вуго. Васассни лълъим гIемер гьекъей рекIее гIечIев дибир васассухъ квеш валагьулев вукIун вуго. Рокъоре щвараб меххалълъ, дицца мун къулгьудалълъе лълъим гьекъезе вачун вукIинчIин, бахъухъ квине вачун вукIанилан, дибирасс вас вуххун вуго. Дадайилан абун буго «гъадидасса цIцIодораб тIанчIицца», жинда рагIун букIанила, лълъим гьекъани, бахъухъ гIемер кваназе кIолилан. Дуцца дида гьеб некIого щайин бицун букIинчIебилан дибирасс вас кIиабизеги вацIун вуго. Лълъедасса лълъетIахъан хIинкъуларо, хIалтIудасса хIалтIухъан лIутуларо. Лълъеде мугъ чIваге, гьерссиде ракI гъоге. Лълъел къимат лъалебила къиндал, чияссул къимат лъалебила хведал. Лълъел цIолеб къулгIаялда асскIоб рукъ бугей эбелалълъул яс ячунге. Лълъел къимат лъалебила къиндал, чияссул къимат лъалебила хведал. Лълъел цIолеб къулгIаялда асскIоб рукъ бугей эбелалълъул яс ячунге. Лъелго вилълъинчIессда рекIадул къимат лъалареб. ЛълъетIа хIуччалги рахъуге, цIцIалкIуялълъ ралъадги буххуге. ЛълъетIасса тIорахь бахъулев. Лълъецца – гьобо, цIецца – кор. Лълъеца ордек биччулареб, бугьтаналълъ чи хъублъуларев. Лълъецца нух балагьулеб, гулица тушман валагьулев. Лълъида бихьарабги – «жиндаго бихьарав», лълъида рагIарабги – «жиндаго рагIарав». Лълъиданиги нилI инжит гьаризе кIоларелила, нилIеццаго гьаричIони, лълъиццаниги гIодорегIанги гьаруларелила, нилIеццаго гьаричIони. ЛълъикI букIаго, патихIа. ЛълъикI вугилан чIухIуге, квеш вукIараб меххги ракIалде щва. ЛълъикI вукIани, вокьулев, квеш вукIани, рихунев. ЛълъикI хьвадарав квеш холаро, квеш хьвадарав лълъикI холаро. ЛълъикI хьвадизеги дурго чорххол иххтияр – духъ, квеш хьвадизеги – духъ. ЛълъикIаб батани – канае, квешаб батани – цIулае. ЛълъикIаб бугъицца къуралде лIар хьвагIулареб, лълъикIав чиясс чияе чIухIи гьабулареб. ЛълъикIаб гара-чIвариялдаги киналълъулго бицунареб. ЛълъикIаб гьудуллъи ххазинаялдасса лълъикIабила. ЛълъикIаб – гьурщулеб, квешаб – баххчулеб. ЛълъикIаб дару кьогIаб букIунеб, лълъикIай чIчIужу хIеренай йикIуней. ЛълъикIаб жо беццизе кколареб; беццунилан квешаб жо лълъикIлъулареб. ЛълъикIаб жоялълъе къей гьечIеб, къадаралълъе бергьенлъи гьечIеб. ЛълъикIаб кечI чIалгIунареб, лълъикIаб ххабар рихунареб. ЛълъикIаб кициялълъул баракат насслабазего щолебила. ЛълъикIаб къайи босеян гьаризе кколаро, лълъикIай яс ячине чи камуларо. ЛълъикIаб къверкъ жибго бижараб хьуцIцIилI чIчIолеб. ЛълъикIаб кIалдибе босе, квешаб гIодобе реххе. ЛълъикIаб лъазе азарго къоги дагьила, квешалде ругъунлъизе цо къоги гIемерила. ЛълъикIаб малълъ босичIессда лълъикIаб къо бихьуларо, эбел-эмен разияв кинго басралъуларо. ЛълъикIаб нассихIат босулареб бетIер – рагьлил асар босулареб ссинухIатI. ЛълъикIаб рагIи – рукъалълъе ххайир, квешаб рагIи – гIадалI базе зар. ЛълъикIаб рагIуда мал бани, квешаб хIехьезе кколеб. ЛълъикIаб рагIул багьа – кьолораб чу. ЛълъикIаб ретIел ретIани, ссурукъайги берцинлъулейила. ЛълъикIаб ххассият берцинлъиялдасса лълъикIаб. ЛълъикIаб ххатIги – бащдаб гIелму. ЛълъикIаб хьоналда – лълъикIаб, квешаб хьоналда – квешаб. ЛълъикIаб хIайваналълъ нилI хьихьулел, квешаб хIайван нилIецца хьихьизе кколеб. ЛълъикIаб хIалалълъ гьарани, эххебе унеб лълъимги лъалхъулебила. ЛълъикIаб цIарагIалда цIадул бетIер букIунеб. ЛълъикIаб цIцIаргун хвейго лълъикI, ххалкъалълъе инжилъун, чIаго вукIинегIан. ЛълъикIаб чое даран гIемераб, лълъикIав чияссе гьудулзаби гIемерал. ЛълъикIаб чое хIалхьи толареб, лълъикIаб хIамие хIалтIи камулареб. ЛълъикIаб чое – цо цIцIал, лълъикIав чияссе – цо рагIи. ЛълъикIаб шитил – лълъикIаб бачIен. ЛълъикIабги бихьагийила, квешабги бихьагийила. КвешлъигIаги щай къваригIараб жоян гьикъараб меххалълъ, магIаруласс жаваб кьун буго: квешлъи бихьичIони, лълъикIлъиялълъул къиматги лъаларила, дагьабниги квешлъи бихьичIев чиясс къо ккараб бакIалда къвалги къаларилан. ЛълъикIабщинаб жубан гьабураб меххалълъ, квешаб жо лIугьунареб. ЛълъикIав Аллагьасс квешаб жо гьабулареб. ЛълъикIав багьадур вагъун хола, хIамабагьадур чIухIун хола. ЛълъикIав бахIарчи лълъикIаб рагIиялълъ тамахлъулев, къадарав бихьинчи лълъикIаб бицанагIан къвакIулев. ЛълъикIав бахIарчи ццеве тамахлъулев, нахъа къвакIулев; къадарав бахIарчи ццеве къвакIулев, нахъа тамахлъулев. ЛълъикIав бахIарчиги вукIунев, цIакъав бахIарчиги вукIунев. ЛълъикIав бахIарчияссдасса щивниги хIинкъуларев, къадарав чияссдасса киналго хIинкъулел. ЛълъикIав бахIарчияссул вас къадаравиланги тоге, къадарав чияссул вас бахIарчийиланги тоге. ЛълъикIав бихьинчи чIчIужугIадангун вагъуларев, лълъикIаб хIелеко гIанкIугун багъулареб. ЛълъикIав гьудул гьечIессда жиндирго гIайибал лъаларел. ЛълъикIав гьудулассда данделъараб къо – тIолабго дуниял дуе щвараб къо. ЛълъикIав инссул квешав васги, квешав инссул лълъикIав васги вукIине бегьулев. ЛълъикIав-квешав чи лъала, гьудулассухъ балагьун (Дур гьудул щивали бице, цинги дицца мун щивали бицина). ЛълъикIав мадугьал гьечIев чи – бищунго чиякъав чи. ЛълъикIав мадугьал кинав ватаниги ваццассдасса лълъикIав. ЛълъикIав хIакимасс гIадлу жиндассангойила байбихьулеб. ЛълъикIав чиясс квешлъи гьабурассеги лълъикIлъи гьабулеб, хIалихьатав чиясс лълъикIлъи гьабурассеги квешлъи гьабулеб. ЛълъикIав хIалтIухъанассул кIал чIчIун букIуна, кверал хIалтIулел рукIуна; квешав хIалтIухъанассул кIал хIалтIулеб букIуна, кверал чIчIун рукIуна. ЛълъикIав чигун квараб ххинкI квешав чигун квараб гьоцIцIоялдасса гьуинаб. ЛълъикIав чиясс жибги чIваларин, къадарасс чIвазе жибги чIчIеларилан абурабила гIодоб рещтIараб хIанчIчIицца. ЛълъикIав чияссда гIадамал цIакъаллъун рихьулел, квешав чияссда бищунго цIакъавлъун живго вихьулев. ЛълъикIав чияссе гьабураб лълъикIлъи – нухде бараб тIехх; квешав чияссе гьабураб лълъикIлъи – гьойдуе гьабураб хьит. ЛълъикIав чияссе гIумру дагьаб, гIабдалассе хвел дагьаб. ЛълъикIав чияссе лълъикIаб мацIцI рекъола, квешав чияссе квешаб мацIцI рекъола. ЛълъикIав чияссе лълъикIлъи гьабуни, лълъикIлъиялълъе батулеб, квешав чияссе лълъикIлъи гьабуни, бадиб багъизе батулеб. ЛълъикIав чияссе рецц-бакъ къваригIунаро. ЛълъикIав чияссе – цо рагIи, лълъикIаб чое – цо цIцIал. ЛълъикIав чияссул багьа – данд цIцIараб месед. ЛълъикIав чияссул букIунеб жо – гьари, квешав чияссул букIунеб жо – хьами. ЛълъикIав чияссул васассулI, кигIан квешав вугониги, цогIаги инссул гIаркьел камулареб. ЛълъикIавги квешавги ватIа гьавизе гьойдаги лъалев. ЛълъикIавги квешавги чи чодаги лъалевила. ЛълъикIавги рагIулевила, квешавги рагIулевила. ЛълъикIавги хола, цин-цин лълъикIлъиги хола. ЛълъикIай лълъадиялда бащадаб жо щибго гьечIеб. ЛълъикIай чIчIужу – анибго алжан, квешай чIчIужу – анибго жужахI. ЛълъикIай чIчIужу горбогьод гIадай йикIуней. ЛълъикIай чIчIужу, нуцIцIихъан къватIие йитIани, гордухъан нахъ юссун ячIунейила. ЛълъикIазулIа хъамурай, хъахIазулIа йищарай бищун квешай ятарай. ЛълъикIал ракьулIе уна, квешал кьочIчIокье уна. ЛълъикIалда мал бани, квешалда къвал базе кколеб. ЛълъикIассда ккараб налъи – нахъарукъ, квешассда ккараб налъи – магIирукъ. ЛълъикIассдассан – лълъикIлъи, квешассдассан – квешлъи. ЛълъикIассул лълъикIлъиги квешассул квешлъиги кидаго кIочонареб. ЛълъикIго кьолеб микьирги, тIадго арав гьоболги. ЛълъикIлъи бихьарассул – кар, квешлъи бихьарассул – малъ. ЛълъикIлъи гьабе дуе квешлъи гьабурассеги, тIасса лIугьа дудасса къолессдассаги. ЛълъикIлъи гьабе, квешлъияли жибго бачIина. ЛълъикIлъи гьабизе кIолареб батани, квешлъигIаги гьабуге. ЛълъикIлъи гьабулел Аллагьассда кIочон толарел. ЛълъикIлъи гьабурав аххир воххулев. ЛълъикIлъи гьабурассе баркала кьейги – мухьалда бащалъулеб. ЛълъикIлъи гьабурассе квешлъи гьабичIого, сордо рогьунаребила. ЛълъикIлъи гьабурассул квешлъиялдасса цIунаги. ЛълъикIлъи гьабурассул лълъикIлъиги квешлъи гьабурассул квешлъиги аххир-къадги жидеего ратулелила. ЛълъикIлъи гьоркьоб гьечIеб квешлъиги, квешлъи гьоркьоб гьечIеб лълъикIлъиги букIунаребила. ЛълъикIлъи гIадада холареб. ЛълъикIлъи кватIулебила, квешлъи ххеххго тIаде щолебила. ЛълъикIлъи-кумек гIагаразе гIадин гьабе, даран-базар чияразе гIадин гьабе. ЛълъикIлъи лъаларев чияссе лълъикIлъи гьабурав чи – хIамида меседил кIиликI барав чи. ЛълъикIлъи лълъикIав чияссда гурони лъалареб. ЛълъикIлъи малълъарав – тушман, тIад рекъарав – гьудул. ЛълъикIлъи хIехьезе аххтачодаги хханассул васассдаги гурони кIоларебила. ЛълъикIлъи хIехьечIесс, квешлъи хIехьолеб. ЛълъикIлъиги бихьаги, лълъикIлъиялълъул къимат лъазе; квешлъиги бихьаги, квешлъиялълъул кьогIлъи лъазе. ЛълъикIлъиги квешлъиги – кIиябго чияссдассан. ЛълъикIлъиялда ххадуб квешлъиги, квешлъиялда ххадуб лълъикIлъиги камулареб. ЛълъикIлъиялда ццебе – квешлъи, квешлъиялда ццебе – лълъикIлъи. ЛълъикIлъиялда данде лълъикIлъи гьабизе кIвечIони, кIочонтунгутIиги – мадар. ЛълъикIлъиялдасса квешлъи бергьунареб. ЛълъикIлъиялълъ квешлъи гьабулареб, квешлъиялълъ лълъикIлъи гьабулареб. ЛълъикIлъялълъе бицараб рагIи ссадакъа бугила. ЛълъикIлъиялълъе гIей гьечIебила. ЛълъикIлъиялълъул лълъикIлъиги холареб, квешлъиялълъул квешлъиги холареб. ЛълъикIлъиялълъулги квешлъиялълъулги тIанчIи гIемерал. Лълъим бахунелълъул гурони, чахъдада бацI кIочонареб. Лълъим бегараб гьобо гIадин. Лълъим бегараб гьобо гIадинги вукIунгейила, цIцIадае гъугъалеб зоб гIадинги вукIунгейила. Лълъим гьечIеб кIкIалахъ вукIун, лълъадад чи гIорцIцIуларев. Лълъим гьечIеб магIарда чу кIутIулареб, къачIеб магIардасса ххер бецулареб. Лълъим гIемерабгIан гIор – гIодобе биччараб, гIакълу цIцIикIкIаравгIан чи – гIамал берцинав. Лълъим гIемерлъунилан ралъад гьалаглъулареб, гIелмуялълъул цIунилан керен хIалуцунареб. Лълъим гIодобе тIолебилан, цадахъ лъимерги реххуге. Лълъим дагьлъани, гьобо чIчIола, кванил низам биххани, черхх загIиплъула. Лълъим дагьлъигун, гьабил гIузраби тIатуна, херлъараб меххалълъ чорххол гIузраби тIатуна. Лълъим рахънибе ккола, чи нухде ккола. Лълъим ссвакаларебила, сабаб тIагIунаребила. Лълъим тIад речIчIичIони, раква ссверулареб. Лъимадул бетIер унтани, эбелалълъул ракI унтулебила. - Лълъицца вакарав? - Дадацца. - Лъицца хьихьарав? - Дадацца. Лълъицца хъван бугебали балагьугейила, кин хъван бугебали балагьейила. Лълъицца щиб бицаниги, бацIицца ххер кунаро. Лълъицца щиб бицаниги, бищунго гIакълу бергьуна. Лълъудби гIемерав чи холаревани, Инсудада жеги херлъилароан. Руччабазул даран беццарабани, Дарбищил каранда маххел балаан.
- xx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Н n На бокьарассе – на, никIкI бокьарассе – никIкI. На лълъикIаб ссунтIур ххалатаб, гIака лълъикIаб гьанарачIчI ххалатаб. На тIогьода чIчIола, тIутI къеда чIчIола. На – тIогьоде, тIутI – гъоссоде. Нагагь жиб хванани, гIадамал лълъиццадай къосинарилаян ургъел чIванила хераб щайтIаналда. МахIги ургъел чIвагейин, мун хвани, гьел къосинаризе желкьал ругелълъулан абурабила гьелълъул россасс. Нагагь ккелеб лъаларилан, лъабго хьит гьабизабурабила. Нагагьаб балагьалдассаги цIунаги, заман щвечIеб хвелалдассаги цIунаги. Наги тIутIги цадахъ хIалтIуларел. Нагизил къватIал руччун рукIаго, роцIцIаде божи лъоге. НагIадалаялълъул бетIер чIахъаги! Надиршагьассул боял кутакал, чабхъенал гьаризе магIарулал цIакъал. Наиб аралълъуссан нукарги ине кколевила. ГIарахъмегIер къотIун, цо росулIе берталIе унел рукIанила наибги гьессул нукарги. Наиб ригь арав чи вукIанила, нукарин абуни гIолохъанчи вукIанила. Анила къоги, щванила сордоги. Ццеве-ццеве наибги ххаду-ххадув нукарги вукIанила. Цо заманалдассан гьал цо хIоринире кканила. Чанго гали лълъелIан тIамун ххадуб, наибасс абунила: - Я вацц, дунни, канлъи бихьичIого, ккун ватилин хIориниве. ГIолохъанав мунгIаги кин гьаниве ккарав? Нукарасс абунила: Наиб аралълъуссан нукарги ине ккола! – ян. Найицца тIегь кванала, ТIотIоцца гъвесс кванала. ГъоссолI букIун, тIотIоцца ТIогьолI бугеб наялде, Дун лъаларищ, гьвел роццан, Рогьо къабихIаб бала. Кицилъун лIугьарал гьал мухъал руго пасихIлъиялълъул цIцIар арав Инххосса ГIалихIажияссул. Гьесс гьал рагIаби абун руго, кIал квешай мадугьалалълъ, рогьоги бан, цIакъго жив инжит гьавураб меххалълъ. НаккдалI баххчун, варани тIубаларо. НаккдалI каржин къинлъарабила, ххарилI борохь къинлъарабила. Накку гьечIеб гьороре къадакаби унаро, ГIатI-тIехх гьечIеб къвачIиде гIункIкIаз къассд гьабуларо. Накку хъирщун, мугь бищун, Наккдагьороб букIаго, ТIил речIчIун, бохх бекана, Жул речIчIун, бер бахъана. Наку щвараб меххалълъ щибго кьурдула. НакIкI гьечIого, цIцIад балареб, цIцIорол гIор щвечIого, хур бачIунареб. НакIкIаз тIанчIи риччани, кьерхен халалъулеб. НакIкIал тIад тIупараб кьурул гIус гIадин. НакIкIигъотIода пихъ бижуларо. НакIкIикартIиниссан бакъ баккиларо, къарумассдассан жо баккиларо. НакIкIицца цIцIадги бакI бихьун гурони кьолареб, бакъул канлъиги киназего бащад щолареб. Налъи бецIичIого, доб дунялалде аравги, кIудияб мунагьги гьабун, арав чийила. Налъи бугев къурав, къо бугев бергьарав. Налъи бугелълъубе кьезе кIоларев, кьвагьи бугелълъуве ине кIоларев. Налъи гьабизе бигьаяб жо бугоан, бецIизе кколеб къо бачIунаребани. Налъи гьабуна – гьудуллъи хвана. Налъи гьечIев чи – бечедав чи, дагIба-къецц гьечIеб рукъ – рагьараб алжан. Налъи тIубан хварав алжаналълъуве реххулевила. Налъи холареб, би бакъвалареб. Налъуе босулареб рагIи, гIадан божулареб гIумру. Налъукье ккарав эмен васассеги вокьуларев. Налъул берцинлъи бецIийила. Налъул хIуби бекулареб. Налъуцца чи бечелъуларев, бичалълъ рукъ ццебе тIолареб. Намус билизегIан бетIер ками лълъикI. Намус бичани, мун чи вукIунарев, чилъи хвани, дур багьа букIунареб. Намус гьечIеб черххалдассаги цIунаги, чи божулареб гIумруялдассаги цIунаги. Намусалда хъубаб тIанкI лъезе тоге, нахъе бацIцIине захIмалъула. Намусалълъе нугI хIажалъуларебила. Намусалълъул лагълъунги напсалълъул хханлъунги вукIине ккола бихьинчи. Намусги цIунани, черххги цIунани, чияр ракI релълъараб къо бачIунареб. Напакъа ххараб сордо – ххинкIал чIахIияб сордо. Насибалдасса ратIалъиларо, гIажалалдасса ххвассарлъиларо. Насслу гьечIев эмен – гьан гьечIеб ракьа. Нах гIемерлъунилан, карщ холареб. Нах дараялда бахунге, къохьода бахе; ссадакъа бечедазе кьоге, мискинзабазе кье. Нах кваниги – хIажатххана, хIан кваниги – хIажатххана. Нах тIад кколеб, риди гъоркь кколеб. Нахуда букIараб гьой чуруде ккани, чури хIехьолеб; чуруда букIараб гьой нахуде ккани, нах хIехьолареб. НахулI букIараб гел лълъелI чIчIарабила, лълъелI букIараб гел нахулI чIчIечIебила. НахулIе квер биччарай, квасулIе бохх биччарай. Нахъ буссун дудаго речIчIулеб чIор реххуге. Нахъа букIунеб куйдасса кодоб бугеб гIечго лълъикI. Нахъа мунго рекIекълъулеб рагIи бицунге. Нахъа ххутIараб боцIцIи бацIицца чIвалеб. Нахъарукъалда рахал гьечIев (рагIи жаниб лъезе кIоларев чи). Нахъассан кIалъалев чи камуларев, чорокаб мацIцI камулареб. Нахъассан чухъа ккурассул чухъил квенчIчIел дуццаги ккве. Нахъе бахъа, мискинлъи, диеги бакI биччаян абурабила чахъдацца. ВукIун вуго цо мискинчи. Гьессул рукъалълъул ункъабго бокIонги ккун букIун буго мискинлъиялълъ. Гьесс босун буго цо чахъу. Цо заманалдассан чахъдацца абун буго бокIон ккун чIчIараб мискинлъиялда: - Нахъе бахъа гьенисса, гьеб бакI дие дунго гIодоб чIчIезе къваригIун буго, – ян. Мискинлъи къватIибе ун буго. Цоги бокIоналде унги, чахъдацца абун буго, жиндир тIанчIиеги бакI теян. Нахъеги жиндирго нухиялълъе, ххадубги тIанчIил нухиялълъе цо-цоккун бокIналги рахъулаго, гьелълъ мискинлъи киссаго нахъе гъун буго. Нахъе валагьун, гьури биччай, ццеве валагьун, гьорчо биччай. Нахъе лъуна – батана, бичун ана – камуна. Нахъе лъураб жо лъималазегIаги батулеб. Нахъе нух къокъаб букIунебила. Нахъе тараб квен катицца унеб. Нахъе тараб порччое гьобол лълъикIав вачIунев. Нахъе цIцIодорлъизе бихьараб батагиян абурабила царацца бацIида. Нахъеги рагьизе кколеб рагьу бекиледухъ къаге. Нахъеккей – нич. Нахъияссул хIетI ххеххаб, тушманассул квер ххеххаб. Нахърател гьечIого, гьабураб дунял – бухъулаго квараб къвали. Нахърател, лъимал гIиссин рукIаго, гьабе. НацIцI чIвазе зар къваригIунареб. НацIцIал гъана, тIигьа бана. НацIцIида ццин бахъун, цIцIаха цIадае реххулареб. НацIцIие квешезе цIцIаха бухIарабила. НацIцIие хIалае хIанкΙич бахъараб. НацIцIицца къо гуккараб, къвалуцца бо гуккараб. Наял рагъила – гьоцIцIо тIагIина, гIадамал рагъила – рукъ тIеренлъила. Некьида некь бижулеб, мичIчIида мичIчI бижулеб. НекIо лъимадасса лъимаде бихьулеб букIарабила бадибчIвай, гьанже бадисса бадибе бихьулеб бугила. НекIссияб гIумру анищ, гьанжессеб гIакълу анищ! (НекIссиял сонал анищ, жакъассеб гIакълу анищ!) НекIссияб сон гуро, сонссияб къо гуро. НекIссияб сонги букIунареб, сонссияб къоги букIунареб. Нечарав хIажиясс хIеж борххулареб. Нечарассе хIетI кьурав, хIинкъарассе ракІ кьурав. Нечоларищин мун, гьедигIан цIакъ бади-бадиссан баккун букIинеян абурабила къадкида. Нечани жиндие чед щоларилан абурабила къадкицца. Нигат бихьун, гIамалила, гIамал бихьун, жазайила. НигIматазул бетIер-чед, чилъиялълъул бетIер – намус. НигIматазул кIулги – мацIцI, балагьазул кIулги – мацIцI. «Нижецца бекьана!» – ян абурабила хур бекьулелълъул оцол лIаратIа рещтIараб тIотIоцца. Низам гьечIеб бодуе рагъда талихI кьолареб. НилI кьижаниги, мегъ кьижулареб. НилI кьижидалила царгъинире гIункIкIал раккулел. «НилI кIиялго ращалъизе, цо анцIго шагьиги тIаде жубай», – ян гьарарабила мискинав вехьасс мегIер-гIалаххго цIураб гIи бугев бечедав чияссда (...мусру босизе камураб 10 шагьи). НилI рокьуларезда бугIа рихаги. НилI рокьулел гьурмахъ ралагьулел, рокьуларел ратIлихъ ралагьулел. НилI рокьулелги нилIее бокьухъе ххутIаги, нилI рокьуларелги нилIее бокьухъе ххутIаги. НилI хъурмидасса хIинкъулел ратани, хъумур нилIедасса нусцIцIул хIинкъулеб. НилI чиялълъуре ани, нилIер хIал чияда лъала, чи нилIеде вачIани, гьессул хIал нилIеда лъала. «НилIги магIарда гIала къинлъун гьарурал чагIи гурелълъулхха», - ян абурабила гIандиссесс. НилIго нилIехъангойилан абулебила гIатIаххинкIазги. НилIго рижараб бакI – ссверун алжан, бакьулI хIеж. НилIго херлъаниги, ракI бахIарго букIунебила. НилIеда бихьичIеб беццассда бихьун батулебила, нилIеда рагIичIеб гIинкъассда рагIун батулебила. НилIеда гьикъун гуребила талихIги балагьги бачIунеб. НилIеда лъалелдасса лъалареб гIемер букIунебила. НилIеда лълъикI бихьараб балагьалълъе батула, квешабилан ккарабги лълъикIлъиялде буссуна. НилIеда ракь кIочани, ракьалда нилIги кIочонел. НилIеда сон рекъечIони, соналда нилI рекъезе ккола. НилIедего цIцIачIеб цIцIахдацца нилI ххинлъуларел НилIедасса бечедаб бакIалде ригьин гьабиялдасса, гьорода бадире ралагьул, кIущи лълъикIаб. НилIедасса къварилъиялда вугев чиго ватиладаян гьикъарабила, гамаги гъанкъун, цо хъорщода ххутIарав васасс инссуда. НилIедасса къварилъиялда вугин чIчIужуялълъул рокъов вугев россилан абурабила инссуцца. НилIее бокьараб гуребила букIунеб, Аллагьасс хъварабила. НилIее гьалулареб хьагиниб гьвел бетIер белъа абе. НилIее зарал гьечIони, инсан Аллагьасс вижахъе къабул гьавизе кколевила. НилIее кIал кьолев, чияе ракI кьолев гьудулассдасса цIунаги. НилIее пуй гуреб, гьорой хьвай гуреб. НилIее хъвараб чияда бихьулареб. НилIее чед гурев, чияе гурга гурев. НилIеего тараб – месед, течIого бицараб – гIарац. НилIер балагьалдасса чи цIунаги, чияр балагьалдасса нилI цIунаги. НилIер бихьун, чи кантIугеги, чияр бихьун, нилI кантIаги. НилIер вугони – цIцIодор, чияр вугони – гIабдал. НилIер гIайиб чияда лъалеб, чияр гIайиб нилIеда лъалеб. НилIер гIодизегIан, эбел чияр гIоди лълъикIаб. НилIер къвачIицца кквечIеб чияр таргьицца кколареб. НилIер кIалалълъ кквечIеб чияр кIутIбуз кколареб. НилIер лъимер – гъветI, лъимадул лъимер – пихъ. НилIер хъахIба чияда лъалей, чияр хъахIба нилIеда лъалей (НилIер хъахIба – чияда, чияр хъахIба-нилIеда). НилIер хIалтIудасса Аллагьассул къоял гIемерал. НилIер чехь унтун букIин чияда лъалареб. НилIер чехьги бугилан, чияр тIеххги бугилан, чохьол чIоло бичуге. НилIер чи хвей – тушманассе бертин. НилIер-чияр чи лъазе, чи чIвалареб кьал ккаги, кьолбол гьуинлъи лъазе, холареб унти чIваги. НилIерабго баххчун, чияраб гьурщун. НилIерабго – чинква, чияраб – курак. НилIерал чияда лъалел, чиярал нилIеда лъалел. НилIералго чинква гьарун, чиярал цIулакьо гьарун, хьвадугейила. НилIерго бакI – алжан, чияр бакI – жужахI. НилIерго васассул вас лIугьинчIони, нусалълъулги яс лIугьунарей. НилIерго вугониги, чияр анищан ккаравги вукIуневила чи. НилIерго гъоссодассанила нилIго хъущтIулел. НилIерго квенги кванан, нилIерго ретIелги ретIун, чияр ургъалида рукIунгейила. НилIерго лаченалълъул чияр бакIалдасса бачIараб гъадилгIан къимат гьабуларебила. НилIерго лъарацца чияр гIурул хъуй рагIизе толаребила (нилIерго лъарал гьаракь бугони, чияр гIурул гьаракь рагIулареб) НилIерго лъимал – “кIарчанал”, чияр лъимал – “гIадалал”. НилIерго лъималги ццере тун, чияразда малълъаруларел. НилIерго малъаз гIадин нилIер мугъ хъассулареб. НилIерго рукъ гIадаб бакI гьечIеб, хъизамалде гIадаб рекIелгъей букIунареб. НилIерго реццалълъ гIадин, чияр реццалълъ нилIее зарал гьабуларебила. НилIерго хъорщода чиниги тун, чияр горда бугеб щагIида баххиллъуге. НилIерго хьитинибе ккечIеб цIаялълъ хIетIе бухIуларо. НилIерго хIал нилIеда лъала, чияр хIал чияда лъала. НилIерго чарухъ чияр чакмаялдасса лълъикIаб. НилIерго чи – чинкир, чияр чи – курак. НилIерго чияссда асскIове арав гIодулаго вачIуневила, чияда асскIове арав гIагIадулаго вачIуневила. НилIерго чияссда гIайиб чIвани, «лъаларо, валагь», – ан абулебила. НилIерго чияссул гIамал хераб оцол гIадаб букIунеб, чияр чияссул гIамал хIал кколареб басидул гIадаб букIунеб. НилIерго чияссул хIалтIудасса хIал хьолареб, чияцца гьабулеб гIемерлъун бихьулеб. НилIерго чундул гIадал ясал – чияе, чияр пахълаби – нилIее. НилIерго ябучу чияр бекерухъаналдасса нусцIцIул лълъикIаб. НилIецца вахине гохI балагьарасс нилI реххизе кIкIал балагьулебила. НилIецца лъималазе цо гьересси бицани, лъималаз нилIее къого бицунеб. НилIецца ракь цоцIцIул маххссараде ккуни, ракьалълъ нилI нусцIцIул кколел. НилIецца цIцIали лъабго къоялълъ тани, цIцIалиялълъ нилI лъабго моцIцIалълъ тола. НилIецца чIолорхъо бачIеб чияр чол ургъел гьабизе кколареб. НилIеццаго абураб берцинаб, чияцца абураб ссурукъаб. НилIеццаго гьабичIеб нилIее батулареб. НилIеццаго гьабунщинаб – лълъикIаб, чияцца гьабунщинаб – квешаб. Нисул даран лъалев, дадил хIал лъалев. Нису тIамун тIехх кванан рукIин лълъикI, тIад вугев чияссе наку чIвазегIан. Нису тIамун тIеххгIагийищин гьезул гьечIебилан абурабила Бахху-бикацца. Аваразул ххан Баххубикада бицарабила хханлъиялълъул ххалкъ бакъун-къечон бугилан. Гьелълъги данде гьадинаб жаваб кьурабила. Нич бахъарассдасса бер бахъарав лълъикIав. Нич бугессда намусги букIуна. Нич буго чилъиялълъул гIаламат. Нич гьечIелълъуб намус гьечIеб, намус гьечIелълъуб нич гьечIеб. Нодо берцинлъизе – кьенссер, кьибил берцинлъизе – цо чи. Нодо букIкIарассул гьобол ххеххго унев. НолIссиялда саву ккарав, сонссиялде гIазу барав. Носол балалда бараб жойила чияссул ияхI. Носол мацIцIалълъ цIцIан босарай, цIцIел лIаралълъ бог босарай. Носоцца гуро къотIулеб, квералълъин. Носоцца тIад лъураб жо гурони къотIулареб, мацIцIалълъ кинабго къотIулеб. Нохъо бацIцIалъиларо, нохъо чороклъулеб гIамал течIони. «Нохъо чорок! Нохъо чорок!» абун рогьо бан буго цо хIинчIчIалълъ кидаго жиндир бусен бигун букIунеб цоги хIинчIчIалде. Чорокаб хIинчIчIалълъ абун буго: «Доб нохъояли некIого тараб дицца». Рогьо баралълъ жаваб кьун буго: «Нохъо тунилан, нохъо бацIцІалъиларо, нохъо чороклъулеб гIамал течIони». НугI гьечIеб жо – гьересси. – Нуж кин ругел, бихьинал? - ЧIчIужу квешал квеш руго. - Нуж кин ругел, бихьинал? - ЧIчIужу лълъикIал лълъикI руго. Нуж лълъикIанила гъолълъухъ дир бадиссан ралагьизеян абурабила гIолиласс (дур йокьулей ссурукъай йигилан абидал). Нуж къосунгутIизе дицца нужее толеб бугила кIиго хIикмат: Аллагьассул тIехьги Аварагассул мисалги. Нуж цIакъалилан реццани, хIамикIучIалги кьурдулелила. Нужгияли, дир лагъзал, лълъикIал чагIи гьечIилан абулебила Аллагьасс, роцIцIани, кьерхагиян гьардолила нуж, кьерхани, роцIцІагиян гьардолила. Нужее нужерго лъимал гIадиналин эбел-инссуе нужги рукIарал. Нужее нужерго лъимал гIадинин чияе жидерго лъималги рокьулел. Нус йокьуларей якьадалълъул вас хваги! Нус лълъикIаб жоани, васассул чIчIужуялдеги нусилан абилароан. Нус ячунеб меххалълъ ххинкI къаниги гIолилан абулеб, ячараб меххалълъ чед гьабуниги гIолареб. Нусал барщани, ваццалги барщулел. Нусалда бичIчIизе ясалда абулеб, оцода бичIчIизе булагьиналда кьабулеб. Нусги якьадги – ракьаги нусги. Нусго гурила, дирай, ххвалчен йигила. Нусго гъурущ гьечIони, азарго гъурщил зарал кколебила. Нусго гьудулассул ххайиралдасса цо тушманассул зарал кIудияб. Нусго къоялълъ борчунебила ярагъ, цо къоялълъ къваригIунебила. Нусго къоялълъ гIанкIулъуналдасса цо къоялълъ хIелеколъунго лълъикIила. Нусго оцол бетIергьанасс чияда чIвантI гьарарабила. Нусго соналълъ рарал каказдасса ритIухълъиялълъул сагIат бергьунебила. Нусго томеналълъул багьаябги букIунебила гьересси. Нусгоялда гьоркьой цо гурони чIчIужуги ятуларей, нусгоялда гъорлI цо гурони чуги батулареб. Нусгоясс гьабураб цоясс биххулеб. Нух бачине гъеду тани, рещтIен рощногохIда гьабулеб. Нух бихьидал, хьит букъарай, гьобол вачIиндал, рукъ лълъухьарай. Нух гьечIеб кьуру букIунареб, кьо гьечIеб гIор букIунареб. Нух къваридав чи – хьитал къваридав чи. Нух гьечIеб кьурулIе кьоялги лъоге, кьолареб бакIалде ххиялги лъоге. Нух къокъ гьабулеб жо – ххабарила, ххабар къокъ гьабулеб жо – гIакълуйила. Нух лълъикIабани, нухда ххер бижилаан. Нух цо гьабе, роцен кIиго гьабе. Нухда вахъунелълъул нухлулавги вище. Нухда гIажал батугеги, гIодоб балагь батугеги. Нухда данде ккезе бищунго къваригIел гьечIев чи – меххтарав чи; къавулIе вачIине бищунго къваригIел гьечIев чи – меххтарулев гьудул. Нухда данде ккун, чи лъаларо, черххалълъул гIамалал цIцIан рихьичIони. Нухда дарулъун ккаги, данде сабаблъун чIваги. Нухда иналде гьалмагъ валагье, рукъ босилалде мадугьал цIеххе. Нухда унелълъул, радал ххеххго вахъа, бакъанида ххеххго рещтIа. Нухдаги данде чIвагеги баракат гьечIев чи. Нухлул кIалтIу – гъанссито. Нухлул ххалалъиялде валагьуге, чIчIолелълъуве валагье. НухтIе щвезегIан – тIехх, тIохтIе щвезегIан – карщ. Нухъа бахъаралълъуб хъвек рещтIунеб. Нухъаялълъ абурабила, роццалда рекъараб гурони, чIимихх къулчIчIугейилан. Нухъил бер гъадицца бахъарабила Нуцалчияссе, киве аниги – бертин. Нуцалчияссул квергIанаб гьан тIокIаб, гъудгIанаб би тIокIаб. Гьаб букIана рагIияталда тIад жидер иххтияр щулалъизе, гьезда гьоркьоб жидер къадру-хIурмат букIине нуцабаз, хханзабаз ургъун бахъараб кици. НуцIцIа гъезегIан – гъелдареч, хур бачIинегIан – пурчIина. НуцIцIа гьадил бугониги, нукьдул меседилал руго диралълъул. – НуцIцIа къире, къоролай, къватIив ххутIулев вугин; къоно ричIе, хIурулгIин, хIатIал квачалел ругин. - Божиларо, гьабигьан, хIурул цIураб магжида. - Божа, божа, къоролай, дурго къвачIаги ххинин. НуцIцIида нахъа хьитги батугеги тIинчI-якьадалълъул. НуцIцIида нахъе ялагьарай яс гьаюгеги, кIалалълъе валагьарав вас гьавугеги. НуцIцIил кIалтIаго – хIеж, хIобокьго – алжан (лълъадилъун ячинессей яс мадугьалихъго ятидал...).
- z | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Й y 1. «Юргъа бачани, бетIергьанчихвад, мун чияца рекIуна». Мискинав магIарулассул букIун буго лълъикIаб тайичу. Гьеб лIугьун буго юргъа бачине. Кицилъун лIугьарал гьадал рагIабиги абун, мискинчиясс тайичу тамахлъизегIан бухун буго. 2. Юргъаялълъ – чу, ишалълъ – чи. 3. Я гьанив гурев, я дова гурев. 4. Я гIарцул чванта цIела, я салул гвангвара цIела. 5. Я гIурул рагIал, я мугIрул ракьан. Гуржиялълъа вачIарав гьобол вукIаравила. Хханасс гьессда гьикъарабила кив мун чIчIелев, кинаб бакI дуе бокьилебан. Гьесс тIасса рищаралила магIарул ххалкъалда гьоркьор абилъун ххутIарал гьадал бакIал. 6. Я зурзур те, я квен те. 7. Я къали чIвай, я зурма пуй. 8. Якьадалълъ лълъухьизе нусалълъ тун, нусалълъ лълъухьизе якьадалълъ тун. 9. Я хIама хвела, я хан хвела. 10. Я мими гурев, я дуду гурев. 11. Я нилIерго хIал, я хIалае чи. 12. Я ракьа гуреб, я гьан гуреб. 13. Я тIинай кIудияй гIела, я кIудиялълъул росс хвела. 14. Я хваралълъ гурев, я гIуралълъ гурев. 15. Я ццее гурей, я нахъа гурей. 16. Я ццудунав вас лълъикIав, я хъукьав вацц лълъикIав. 17. Я чехь цIцIалтараб квен, я квер цIцIалтараб мухь. 18. Я чи хIинкъулеб черхх, я чиякьа хIинкъулареб ракI. 19. Ябуялда юргъачу белъулеб, юргъачуялда ябучу белъулеб. 20. Ябуялълъ ябу кколеб, бидаялълъ бида кколеб. 21. Ярагъ борчинеги мун нечолелълъул, Дуе тIил къотIизе дун кие иней? Чода рекIинеги мун хIинкъулелълъул, Дуй хIама босизе дун кие иней? 22. Ярагъ борчинеги чи къваригIуна, чода рекIинеги вас къваригIуна. 23. Ярагъ гьечIого, чанаве арав, чан щвечIого, вуссуна. 24. Ярагъ гьечIого, чи вагъуларо. 25. Ярагъ гIумруялълъ борчунеб, цо къоялълъ къваригIунеб. 26. Ярагъ къеда бай, къалам кодоб ккве. 27. Ярагъ лъалиниб цIуне, рагIи гIаданиб цIуне. 28. Ярагъги борчине, чуги рекIинейин вас гьавулев. 29. Яргъил кьвагьиялдасса квартIил кутIи берцинаб. 30. Яргъил рагъ букIунареб, кIиябго рахъалдассан би баккулареб. 31. Яргъицца цояв чIвалевила, мацIцIицца анцIгояв чIвалевила. 32. Яс абизе рачIарал жидерго бечелъиялълъул бицине лIугьиндал, инссуцца абурабила - «Гьеб гIолеб батани, лълъидассаго лълъикI гьай хьихьизе дидаги кIола». 33. Яс абураб соналълъ васгун кIалъаге, яс унеб нухдаги чIчIоге. 34. Яс гьайилалде дурцц гьавуге, гьезул къадар Аллагьассда гурони лъаларо. 35. Яс гьаюраб къоялдасса нахъе къайи босарай эбелалълъул ражихо камун батарабила. 36. Яс гьаюраб къоялълъ чехь бухIулеб, гIураб къоялълъ рукъ бухIулеб. 37. Яс гьечIей эбел, унти чIварабго, холейила. 38. Яс гIейгун, гIеретI бекулеб гIадат. 39. Яс йихьулеб матIу – расайила. Васассе чIчIужу ячине ургъулел рукIун руго. Васасс абун буго мадугьалихъ ругел ясазда гьоркьой бищун лълъикIай пуланай яс йигилан. Эбелалълъ абун буго, дуда ясал лъалел гьечIин, батIияй яс лълъикIай йигилан. Васассда жий йитIарай йикIин бихьизабизе, эбел, унтараб ххвелги гьабун, егун чIчIун йиго. Мадугьалзабазул ясаз, раккизеги рачIун, гьелда щиб бокьилеб, гьечIищ хьул лъураб жогоян гьикъун буго. Эбелалълъ гьезда абун буго, раса хъвагIараб жоялълъул гурга щвани, ссундассаго гьеб бокьилаанилан. Эбелалълъ лълъикIайлъун рикIкIуней яс тамашалъун йиго, гурга гьабизе гIураб гIатI росода киб букIинебан. Васассе йокьарай ясалълъ абун буго жидер росода бугин, чед гьабизе бокьаниги гIурабан. 40. Яс йичуге, нус йосуге. 41. Яс йокьун, дурцц вокьулев, нус рихун, вас рихунев. 42. Яс кьезе кIиго соналълъ ургъейила, вас тIувазе сордо-къоялълъ ургъейила. 43. Яс хьихьулеб жо – эбел, цIа босулеб жо – гъецI. 44. Яс цIцIодорай лIугьаги, вас лумияв лIугьаги. 45. Яс цIунизе вас тоге, гIи цIунизе бацI тоге. 46. Яс юххичIей эбелалълъ накаби руххизе кколел. 47. Яс эбелалда, вас инссуда релълъаралила лIугьунел. 48. Яс эбелалда релълъарай яче, чу гIалаялда релълъараб босе. 49. Ясалдасса лълъикIай нус йикIинеги бегьулей, васассдасса лълъикIав дурцц вукIинеги бегьулев. 50. Ясалълъе рагIи бициналде, дурцц сапаралълъ цадахъ ккезаве. 51. Яхине кьуру гуреб, кьурдизе майдан гуреб. 52. ЯхI бичун, чед босуге, чилъи бичун, багьа босуге. 53. ЯхI бугессе дуниялги хоб. 54. ЯхI бугей лълъади россассдасса бергьинаро. 55. ЯхI гьечIессул цIцIобалде ккогеги, цIцIоб гьечIессул кверщаликье ккогеги. 56. ЯхI цIецца бухIулареб, гIакълу гIоралълъ унареб. 57. ЯхIалълъ къо реххугеги, къуваталълъ некь реххугеги. 58. ЯхIги рухIги – бащадаб жо. 59. ЯхI-намус гьечIев нусго бечедассдасса намус бугев цо мискинчиго лълъикI. 60. Яццалълъул ракI – ваццгун, ваццассул ракI – рохьоб. 61. Ячеян дуда гьардезе ккогеги, ячIаян мун гьардезе ккогеги. 62. ЯчинегIан «эбелхвад», ячун ххадуй «мунгохвад». 63. Ячудасса нусалълъ вакьадассде дадайилан абулебила, дагьаб ххадуб дандамадилан абулебила. 64. Ячун щваралдасса ячIун щварай лълъикIила. 65. Ячунги ячуней лълъади, ячIунги ячуней лълъади. 66. Ячуней мекълъугеги, ячIуней тIекълъугеги. 67. ЯчIунелълъул – «далалай», дун толелълъул – «вабабай».
- m | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Ч x 1. Чабхъадул боцIцIи чабхъацца унеб. 2. ЧагIиги чIвачIого, чуги хвечIого, хъала бахъулареб. 3. Чадикълъи бихьаниги, чиякълъи бихьугеги. 4. Чадил къимат гьабичIессда къо квешаб бихьулеб. 5. Чадихъ гьан бичарав, дур чара хваяв, Чохьоцца реххарав, дур чилъи хваяв. 6. Чадицца цIунилилан цIцIодорлъи гIодоб тоге. 7. Чали гъазихъацца кколеб, гъарим пакъирасс кколев. 8. Чалуххай чIчIужу россассеги йокьулейила, росдаеги йокьулейила. 9. Чан батIияв, чан тIекъав, чан гIажизав, чан гIабдал. 10. Чан бахIарчи къосарав кухIлу бугел бераца, каранзул кIичIал ричIун, жаниве ваккизегIан. Чан меседу къосарай, къачIарал васал рихьун, къвал байдал, борохь батун, хьолбода жемизегIан. 11. Чан боцIцIи гьечIев гIалим гIодов ххутIарав, чан боцIцIи гIемерав гIабдал гIаршалде вахарав. 12. Чан гьабизе бигьаяб жо буго, чилъи гьабизе захIматаб буго. 13. Чан гьитIинаб бетIералълъ кIудияб бетIер къотIараб, чан гьитIинаб къукъа кIудиялдасса бергьараб! 14. Чан гIакъил вугев гIабдалассул малълъалда гъоркь! 15. Чан гIалимассул гIелму мискинлъиялълъ каранда жаниб ххутIараб! 16. Чан жагьилав гIабдал боцIцIуцца жаниве вачарав! 17. Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасса чи тIурулеб, чан зарараб жо бугеб, жиб тун чи вукIунареб. 18. Чанаре рачиналде гьаби кваназаруларел. 19. Чанахъанассул гьан биццатаб, гьабигьанассул чед биццатаб. 20. Чанахъанассул пишаялда баракат букIунареб. 21. Чангит барабщинаб чу букIунаро, чухъа ретIанщинав чи вукIунаро. 22. Чанго бихьичIого, рохьобе туманкI (ГIила гьечIого чияда гIайиб чIваге). 23. Чание мегIер лълъикIаб, чодуе авлахъ лълъикIаб. 24. Чанил бице чанахъанассе, чол бице чотIахъанассе. 25. Чаницца кьуру тун буго. 26. ЧанцIцIул борцаниги, хIамил рачIалда цого натIила. 27. Чара хвани, лочноцца гъадилгун чан гьабула. 28. Чаран къвакIула бацIанагIан, бахIарчиясс къо хIехьола хIал цIцIикIкIанагIан. 29. Чаран мугъалде ккун буго. 30. Чаранги биунеб, цIел хIал батани, гамущги меххтулеб, гIемер гьекъани. 31. Чаргъеду парххунилан, бакъул нур ссвинаро. 32. Чарухъаз гьабун, чакмабаз кваналеб заман бачIун буго. 33. Чахъаби ругони, вехь камиларо. 34. Чахъабиги цIунун, бацIалги гIорцIцIун. 35. Чахъдал къинлъиялдасса куйдул багьлъи бергьунеб. 36. Чахъдал тIом ретIараб чакъал гIемераб. 37. Чахъдал цIцIолъи бихьидал, цIцIе белъарабила. 38. Чахъдацца цIцIараб цIцIеде бачунге. 39. Чахъу гIорцIцIулареб, гIорцIен къинлъулареб. 40. Чахъу чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги багIарабила. 41. Чванта тIадагьлъани, гьудулзаби дагьлъулел. 42. Чвантида кIулал рарав. 43. Чвантиниб гIарац бугони, магIардаги ах гьабулеб. 44. Чвантиниб гIарац бугони, эбелалълъул къвалакьа яхъунги, яс кьолейила. 45. Чвантиниб гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIащтIи кодоб гьечIого, рохьове инго лълъикIаб. 46. Чвантиниб месед бугони, росулI яс камуларо. 47. Чваххулеб лълъадае нух камулареб. 48. Чваххун балеб цIцIад гIадав, щун бачIунеб гIор гIадав. 49. Черхх херлъаниги, ракI херлъулареб. 50. Черххалда гIакъуба бихьичIони, чехьалда рахIат бихьулареб. 51. Черххалда ракI чIчIоге, чи данде ккезе гурин! 52. Черххалда хIур бахинчIони, хIарччида нах бахунареб. 53. Черххалдасса гIорцIцIуге, къуваталдасса чIухIуге. 54. Черххалълъул цIцIайи цIцIадирабаз бицуна, чилъиялълъул цIцIайи мацIцIалълъ бицуна. 55. Чехь бакъарав, рукъ мискинав – умумузул къо-ассалдаса чIухIарав. 56. Чехь бакъунилан, рукъи балареб. 57. Чехь бухIуларессде рекIел ургъел бикьуге. 58. Чехь бухIун гIодани, беццаб бадиссаги магIу бачIунеб. 59. Чехь бухIун ракIалда ккураб жо киданиги кIочонареб. 60. Чехь гIорцIцIаниги, бер гIорцIцIуларев. 61. Чехь гIорцIцIарав – бер бакъарав, рукъ бечедав – ракI мискинав. 62. Чехь квешай кIалалълъе ккогеги, кIал квешай мадугьалихъе ккогеги. 63. Чехь квешасс рукъги бичулеб, ракI квешасс боги бичулеб. 64. Чехь сабаблъун бетIер ссуризе тогейила. 65. Чехь сабаблъун бетIер хварав бетIеркъотI. 66. Чехь цIезегIан кванаялълъ кIкIухIаллъи тIад гьабулеб. 67. Чехь чIвалеб жо – квен, черхх чIвалеб жо – рахIат. 68. Чехьалда рихараб жо нус гурони гьечIебила. 69. Чехьалълъ бетIер какарав бетIеркъотI. 70. Чехьалъеги черххалъеги бокьанщинаб гьабуни, чи бокьове ккола. 71. Чи вихьун, квен кьурал, чу бихьун, хер кьурал. 72. Чи вихьун, чухъа гьабе, гьудул вихьун, ракI рагье. 73. Чи вуххуге – малълъе, чу буххуге – кIалцIи бай. 74. Чи гурессда гьаруге, дурго хIурмат хунгутIизе. 75. Чи гьечIелълъув гIакъиллъун вукIиналдасса гIадамазда гъорлI гIабдаллъун вукIинго лълъикIила. 76. Чи гIемер – чи дагь, чу гIемер – чи дагь (Нагагь гурони, чу батуларо, надир гурони, чи ватуларо). 77. Чи гIемералълъуб гIакълу цIцIикIкIараб. 78. Чи гIемерлъани, гIадлу холеб. 79. Чи даражаялде, захIмат бихьун, вахунев, гIодове бигьаго кколев. 80. Чи къварид гьавурав воххун ххутIуларев. 81. Чи лъала рагIудассан, чу лъала рилълъадассан. 82. Чи лъазе бокьани, гьессие хIакимлъи кьейила. 83. Чи лъазе бокьани, гьессул гьалмагъассухъ ралагьейила (Чи лъазе бокьан, гьудул цIеххе). 84. Чи лъалилан абуге, лъороб гьецIцIо батизе гурин. 85. Чи чохьоццайила мискин гьавулев. 86. Чи хвезе бегьулев жинда чилъун вихьуларев чияссдассанги, чи хвезе бегьулев жинда жолъун бихьулареб унтиялдассанги. 87. Чи чIваларилан кьалги гьабуге, чу ссвакаларилан ахIудги рахъунге. 88. Чи чIван, балагьги бачIунгеги, чияда ццере къулизе ккарал къоялги рачIунгеги. 89. Чидай хIелиялдасса вакъи рекъон букIуна, яхI тун хьвадиялдасса къадру рекъон бихьула. 90. Чилъун лIугьине гIумруги дагьаб. 91. Чилъун лIугьинеялдасса гІалимчилъун вахъине бигьаябила. 92. Чини лъалин, ракI лълъида бихьулеб? 93. Чирахъ баканиги, чIчIужугIадан гьечIеб рукъалда нур букIунаребила. 94. Чирахъ гьечIеб рукъ – хIайван гьечIеб бокь. 95. Чирахъул канлъи гIоларессе бакъул канлъиги гIолареб. 96. Чияда базе бигьаяб жойила зигара. 97. Чияда бицараб жо – росдадаго лъараб жо. 98. Чияда божараб карщ лълъамияб букIуна. 99. Чияда велъуге, дудаго бадибчIвай бихьизе гурин. 100. Чияда гьардоге, дуццаго гьабе, гIедегIуге, лълъикI гьабе. 101. Чияда гьикъарав – гIакъил, гIакъилассда нахъвилълъарав – цIцIодор. 102. Чияда гьикъаралълъе дуцца жаваб кьоге - «ГьикъичIогобиц», – ан дудаго цIцIар лъолеб. 103. Чияда зигара базе инчIев жиндирго къварилъигун ххутIулев. 104. Чияда кверщел гьабизе лIугьарав лълъиего вокьуларевила. 105. Чияда ццебе хъат кквеялдасса хъирул къоно тIад байго лълъикIаб. 106. Чияда ццебе хъат ккурасс черхх бичула, чияе наку чIварасс намус бичула. 107. Чияда – цедер, дудаго – рокьо. 108. Чиядасса тIокIлъарассул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар бугев ххашазе тушманлъула. 109. Чияде абулелълъул, дурго эбелалълъулги пикру гьабе. 110. Чияде хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб. 111. Чияе бухъаралълъуре нилIго кколел. 112. Чияе гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек. 113. Чияе гьересси бицарасс дуеги бицунеб, чияе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб. Искандар Зулкъарнайидаги Дарвануш абулев хханассдаги гьоркьор ккаралила кIикъого къоялълъ гьоркьосса къотIичIел роркьарал рагъал. Дандеяссул къуват цIцIикIкIараб меххалълъ, Искандар хIилаялълъе ургъизе ккаравила. Искандарицца, цIцIикIкIараб къадар гIарац-месед кьезе къотIиги гьабун, Дарванушил кквезе щварав божарав гьалмагъ тIамуравила гьессда хвалил ругънал лъезе. Боги биххун гъоркь ххутIарав Дарвануш хханассда Искандарицца абурабила - «Рецц Аллагьассе, дир квердассан гурев, дурго бищун божарав гьалмагъассул квердассан мун холев вукIин!». Дарванушица абурабила - «Дун дуда тIасса лIугьана, лълъикIав бахIарчи, диени ххиянат гьабурасс дуеги ххиянат гьабизе бугебхха!». ГьебсагIаталълъго Искандарицца ххиянатчи гьессул хханассда ццевеги вачун чIваравила. 114. Чияе ккараб къварилъиялдасса воххарав ххалат воххун ххутIуларев. 115. Чияе нассихIат гьабун, дуццаго мунагь гьабуге. 116. Чияе рагIи бицунге, бицун ххадуб хвезе тоге. 117. Чияе хвел гьаричIого, дуего гIумру гьаре. 118. Чияеги гьабе, дуего гьабизеги кIочон тоге. 119. Чиякъасс ургъел катиде бикьулеб, вехьасс ургъел гьойде бикьулеб. 120. Чиякълъиялдасса чадикълъи лълъикIаб. 121. Чиякълъун чи ххутIугеги. 122. Чиякьа мунго къезе ххиянат гьабуге. 123. Чиякье кIалги ккоге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гьоркьоссанги раккуге. 124. Чияр бадибе унеб рас бихьулев, жиндирго бадибе унеб чIалу бихьуларев. 125. Чияр бакI бихьичIого, нилIералълъулго къимат лъалареб. 126. Чияр бакIалде араб лочнол нилIерго бакIалда бугеб гъадилгIан къимат букIунареб. 127. Чияр бахъухъалдасса нилIерго ххинкI лълъикIабила. 128. Чияр бихьизе – канав, жиндирго бихьизе – беццав. 129. Чияр бицин буго чияр гьан кванай. 130. Чияр бициналде дургоги пикру гьабе. 131. Чияр боцIцIиялда баххиллъизе бегьулареб. 132. Чияр боцIцIутIа бер биххуге. 133. Чияр васассдасса нилIерго яс лълъикI. 134. Чияр гьанадасса нилIерго гьуэр лълъикIаб. 135. Чияр гьорохъе кьурдуге. 136. Чияр гIадалI къараб чIор – гIеркъилI къараб чIор. 137. Чияр гIайиб ккола бачIараб балагь, нилIер гIайиб ккола бачараб балагь. 138. Чияр гIайибал рицунелълъул, мукъулукъ гIатIидав, жиндирго гIайибал рицунелълъул, гIундул раххчулев. 139. Чияр гIакълу босулареб бетIералдассаги цIунаги, бетIер гьечIей чIчIужуялдассаги цIунаги. 140. Чияр гIачIар какилалде, нилIерго басидулги багьа гьабе. 141. Чияр жо бикъарассул квер цIцIогьорабила, чияр жо ккурассул кверги кIалги цIцIогьорабила. 142. Чияр жо чияе те. 143. Чияр квен гьуинав, чвантил кIал къваридав. 144. Чияр квен гьуинлъугеги, чияр рукъ гьуинлъугеги. 145. Чияр кверацца мичIчI бетIизе бигьаяб жойила. 146. Чияр квеш бихьараб тезе кIваги. 147. Чияр кумекалде хьул лъоге, хIалтIун балагье. 148. Чияр куц-бегIалълъул бициналде цин матIуялълъуве валагье. 149. Чияр къварилъи жиндего бачIиндалила бичIчIулеб. 150. ЧIияр къимат гьабуларесс жиндиргоги гьабулареб. 151. Чияр кIиго шагьи ккурав чияссул багьа – кIиго кепек. 152. Чияр мажгиталълъуб как ахIулареб. 153. Чияр маслихIаталълъ росс-лълъади рекъон чIчIоларо, гъоркьагьобоги тIассагьобоги гIадин, цоцалI ххенон, жалго рекъон ккани гурони. 154. Чияр мегеж кквелалде, дургояб къунцIейила. 155. Чияр нахуде хьул лъун, нахударахъал гьаруге. 156. Чияр оц кваналевилан дирго ссан кваналев ватана. 157. Чияр рагIи – тIохде балеб цIцIад (РагIи – къватIиб, дун – рокъов). 158. Чияр ракьалда хханлъун вукIинегIан, нилIерго ракьалда узденлъун вукIинго лълъикI. 159. Чияр ракьалда чи беццав. 160. Чияр ракI релъиледухъ, накуги чIваге, чи чилъун вихьичIого, гьаваялдеги вахунге. 161. Чияр ригьиналда гьоркьове, гIабдал гурони, лIугьунаревила. 162. Чияр риди рахьилан ккогеги, рагьтIа гIака гьечIого ххутIугеги. 163. Чияр рокъоб квен тIагIамабила. 164. Чияр рокъов вугониги, чи лъала, чияда гъоркь бугониги, чу лъала. 165. Чияр рокъов дегIенлъунги вукIунге, дурго рокъов цIцIелъунги вукIунге. 166. Чияр ролIул чедалдасса нилIерго мочол гурга лълъикIаб. 167. Чияр ссадакъаялде саххаватго хьвадулев, жинццаго къватIибеххун къараб гурга кьоларев. 168. Чияр ссурукъ бихьараб дуццаго гьабуге. 169. Чияр тIагъур бахъани, нилIерабго къвалакь кквезе ккола. 170. Чияр хурибе рак баге. 171. Чияр цIакъалдасса нилIерго къадараб лълъикIаб. 172. Чияр цIцIоб батуларо, лълъадал нах бахъуларо. 173. Чияр цIцIоб – лълъадал щар. 174. Чияр цIцIобалде ккогеги. 175. Чияр чода рекIарав ххеххго рещтIуневила. 176. Чияр чода рекIарав хIарщукъотIнов рещтIунев. 177. Чияр чороклъи бихьизабулеб килищ бацIцIадаб букIине ккола. 178. Чияр чурпадулIе цIцIам жинццаго тIамизе те. 179. Чияр чIчIужу берцинайила, чияр чу цIакъабила. 180. Чияраб ссурун бихьун, нилIго кантIаги. 181. Чияралда бер биххарав, жиндирабго цагъриниб лъурав. 182. Чияралда хъваге, дурабго цIуне. 183. Чияразул бицунаго, дургоязулги пикру гьабе. 184. Чияргун гIахьалаб гIаладай, дунго бетIергьанаб хIамадай? 185. Чиясс дуе лълъикIлъи гьабуниги, квешлъи гьабуниги, гьелда нахъа цо гъваца батулебила. 186. Чиясс чи кIодо гьавуни, кIиялго кIодолъулел; чиясс чи инжит гьавуни, кIиялго инжилъулел. 187. Чияссда рекъаралила ишалги рукІунел. 188. Чияссдасса гьессул рагIад ххалатабила, гьессул гьунаралдасса рецц-бакъ борххатабила. 189. Чияссе гьабураб лълъикIлъиялдасса кIудияб ссадакъа гьечIебила. 190. Чияссе – гIамал берцинлъи, къохьое – нах, ратIлие – цIуни. 191. Чияссе – рагIи, хIамие – тIил. 192. Чияссе ссундулго гIей гьечIебила. 193. Чияссул бахIарчилъи борохь чIвазеги къваригIунеб. 194. Чияссул бахIарчилъи – ссабру гьабизе кIвей. 195. Чияссул чилъи жиндирго хъатикь букIунеб. 196. Чияссул гIамал хIакимлъун ккедалила лъалеб. 197. Чияссул ияхI – носол бал гIадаб жо. 198. Чияссул квешаб гIамал бахунеб унтиялдасса квешаб. 199. Чияссул къунтIаб гIамал-ххассият цо рагIудассанги бичIчIулеб. 200. Чияссул кьучIлъи – рагIи, рагIул кьучIлъи – тIубай. 201. Чияссул кIодолъи рарал соназулI гуребила букIунеб, гIакълуялълъулIила. 202. Чияссул хвел чияда бараб гьечIеб. 203. Чияссул хвелгицин берцинаб букIине ккола. 204. Чияссул тушманила жиндаго лъалареб жо. 205. Чияхъе тIагIел кьезе рокъотел виччай. 206. Чияцца гьабичIелълъул бициналде, дуццаго гьабуралълъулги багьа гьабе. 207. Чияцца гьабуралълъе къимат кьезе цIакъ бигьаяб жойила. 208. Чияцца гьабуралълъул гурони, жинццаго гьабуралълъул рогьо букIунарев. 209. Чияцца гьавун, чи лIугьунарев, жинццаго живго лIугьинавизе кколев. 210. Чияцца гьумер бухIизегIан, цIадуцца мегеж чIурхIаги. 211. Чияцца гIакълу малълъун, гIабдал цIцIодорлъуларо. 212. Чияцца кьураб бищунго лълъикIаб жо – гьáричIого кьураб жо. 213. Чияцца кьураб жа гьекъеялдасса живго бетIергьанаб лълъадал рагI гьекъей лълъикIаб. 214. Чияцца чи инжит гьавуларо, цин жинццаго живго инжит гьавичIони. 215. Чияццаниги кваналел Хъилидал багIаргIечал нилIеццаго кванан лълъикIила. 216. Чода рекъаралила тIукъбиги чIвалел. 217. Чода чIвалел магIазул гъанссида чIвалел магIал гьарурав Аллагь! Маххукъебедассул йикIун йиго цIакъ берцинай чIчIужу. Хханассе бокьун буго, гьелълъул россги тIагIинавун, жинццаго гьелдассан кеп босизе. Хханасс лъазабун буго къебедассда, метер радалалде нусго чодуе тIикъва-магI къотIичIони, жинцца мун чIвазе вугилан. Маххукъебедасс рокьукъаб ххабар чIчIужуялълъе бицун буго, кIвелародай рухI ххвассар гьабизеян хIалтIизе къассдги гьабун буго. ГIакъилай чIчIужуялълъ гьессда абун буго - дудассан тIалаб гьабулеб буго инсанассухъан гьабун бажарулареб жо. РачIа, къасси нилI регилин, метералде щиб бугониги ккелеб батила. Цониги магIги къотIичIого, росс-лълъади регун руго. Радакь, нуцIцIидаги тункун, хханассул нукарасс абун буго - «Ххан хун вуго, ххеххго гьессул гъанссида чIвазе магIал къотIизе тIаде вахъа», – ян. Маххукъебедасс гьурмада квер бахъун буго, ццереххун реххссарал рагIабиги абулаго, гъанссида чIвазе магIалги гьарун руго. 218. Чодасса гьоко ццебе унеб. 219. Чодасса рещтIун, хIамида рекIун. 220. Чодуе – цIцIал, хIамие – хIенссеркIо. 221. Чое – кьили, хIамие – гъалдибер. 222. Чое хъулухъ гьабичIони, лъелго рилълъине ккола, хIама лълъикI хьихьичIони, рохь мугъалълъ баччизе ккола. 223. Чол жал кколебилан, хIамил рачIчI ккоге. 224. Чол къимат лъаларев лъелго вилълъине кколев. 225. Чол хIал, гъогъолIе бачани, лъала, чияссул хIал, сапаралде цадахъ ккани, лъала. 226. Чордезе бокьарав лълъекьа хIинкъуларев, хIалтIи бокьулев бокьун вегуларев. 227. Чорххое рахIат гIемер гьабурав нахъа воххуларо. 228. Чорххол гьава цIцIикIкIарав цо хIалалда ххутIуларо. 229. Чорххол гIамал хисугеги, рекIел гIадлу биххугеги. 230. Чорххол гIамал хисугеги, хурул талихI бекугеги. 231. Чорххол сахлъи бараб буго роццада кванаялда, рукъалълъул ракIа-раххари – босаралълъуб босараб лъеялда. 232. Чорххол тIабигIат буго, керен тIуни, батIалъун чIчIолеб, тIечIони, кидаго хахулеб лъимер гIадаб жо. 233. ЧорххолI бугонани, нилIерго рухIги, махIалда бугони, нилIерго хIалги. 234. ЧорххолI бугони – рухI, чвантиниб бугони – гIарац. 235. ЧорххолI бугони – хIал, рокъоб бугони – махIал. 236. ЧорххолI витIарассе кинабго квен татуяб. 237. ЧорххолI витIи гIадаб чода чи рекIунарев. 238. ЧорххолI гьечIеб гьунаралълъ чи ццеве тIун инаро. 239. ЧотIахъанасс чу беццулеб, векьарухъанасс оц беццулеб. 240. Чохьое ияхI гьечIев, ракъуе ссабру гьечIев. 241. Чохьоеги рихьиеги бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколел. 242. Чохьол бухIиялда щибго релълъунареб. 243. Чохьол гурони, мацIцI лъаларев, чадил гурони, бицунарев. 244. Чохьол гьудулзаби чанги ратулел, къваригIиндал гьудул дагьав ватулев. 245. Чохьол дару – гьан, гьанал дару – рокьи. 246. Чохьол унти тIад чIвани, ботIрол унти тIагIуна. 247. Чохьол ургъел гьабуларесс ботIролги гьабулареб. 248. Чохьониб гьунареб кIалдибги гьунареб. 249. Чохьоцца гIадин, чи реххуларо. 250. Чоцца хIатIал росулел, тIад рекIарассухъ ралагьун (Чоцца юргъаги бачунеб, чи вихьун). 251. Чоцца чал кIанцIидал, оцоеги баркала кье. 252. Чоцца чи хIурулI речIчIулев, гIорцIмацца гъогъолI речIчIулев. 253. Чу берцин гьабула кьилиялълъ, чи берцин гьавула захIматалълъ. 254. Чу щведал, кьили щвечIо, кьили щведал, чу щвечIо. 255. Чу беэдун квегъе, чIчIужу еццун куцай (Чу беэде, чIчIужу ецце). 256. Чу босе гьод къокъаб, гьалмагъ ккве калам дагьав. 257. Чу босе, юргъа бихьун, налъи гьабе, чи вихьун. 258. Чу босулесс гьелълъул рилълъин цIеххедал, чол бетIергьанасс абурабила мавлидалде ахIун унев дибирассулалдасса ххеххаб бугилан. 259. Чу гьечIелълъуб хIамаги чуйилан толебила (тейила) 260. Чу, кIалдиб ххер ккун, холеб, къарум, дунялалда ххутIанщиналда ххадув ххачадулаго, холев. 261. Чу лъала, кьолокье ккедал, чи лъала, кьалде ккедал. 262. Чу лълъикIаб чияцца рекIинчIеб, лълъади лълъикIай чияе инчIей. 263. Чу лълъикIасс чодуе хIалхьи толареб, ретIел лълъикIав хьвадулев чIчIоларев. 264. Чу рилълъадассан лъала, чи рагIудассан лъала. 265. Чу хIалае ккун, хIамие кIалцIи щварабила. 266. Чу щолаго, гIорцIен гIабдаласс гурони рекIунареб. 267. Чу щолебги букIун, хIамихъ анищ гьабуге. 268. Чу-ярагъ лълъикIавилан, лълъиданиги цIцIар лъоге, лъалабалъги ратулел тадбир бугел гIадамал. 269. Чуги чIвачIого, чиги чIвачIого, хъала бахъулареб. 270. Чуги ццебе тун, лъалкI балагьулев. 271. Чуги цIцIалги гIола гIолохъанчияссе. 272. Чудкие балкан кинаб бугониги батIалъи букIунареб. 273. Чундузул убуразулI лIар биццатаб бис гIадав, лъарал лълъимазда гьоркьов хъахIилаб ралъад гIадав. 274. Чури бухIараб бахIри гIадин. 275. Чурпадул хIал гъодода лъала. 276. Чурул росода чIван, чIулгIи бекуге (Чи гурев чияссе кьун, лълъикIай яс хвезаюге). 277. ЧурулIа бахъараб гIункIкI гIадин. 278. Чурунилан щагIил чини лIугьинаро, чол русснада бухьунилан, хIамил чу лIугьинаро. 279. Чухъида квер бахъула, хъабчиде квер хьвагIула. 280. Чуял гIемер руго – тулпар цо буго, гIадамал гIемер руго – бахIарчи цо вуго.
- r | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Ч x 1. Чабхъадул боцIцIи чабхъацца унеб. 2. ЧагIиги чIвачIого, чуги хвечIого, хъала бахъулареб. 3. Чадикълъи бихьаниги, чиякълъи бихьугеги. 4. Чадил къимат гьабичIессда къо квешаб бихьулеб. 5. Чадихъ гьан бичарав, дур чара хваяв, Чохьоцца реххарав, дур чилъи хваяв. 6. Чадицца цIунилилан цIцIодорлъи гIодоб тоге. 7. Чали гъазихъацца кколеб, гъарим пакъирасс кколев. 8. Чалуххай чIчIужу россассеги йокьулейила, росдаеги йокьулейила. 9. Чан батIияв, чан тIекъав, чан гIажизав, чан гIабдал. 10. Чан бахIарчи къосарав кухIлу бугел бераца, каранзул кIичIал ричIун, жаниве ваккизегIан. Чан меседу къосарай, къачIарал васал рихьун, къвал байдал, борохь батун, хьолбода жемизегIан. 11. Чан боцIцIи гьечIев гIалим гIодов ххутIарав, чан боцIцIи гIемерав гIабдал гIаршалде вахарав. 12. Чан гьабизе бигьаяб жо буго, чилъи гьабизе захIматаб буго. 13. Чан гьитIинаб бетIералълъ кIудияб бетIер къотIараб, чан гьитIинаб къукъа кIудиялдасса бергьараб! 14. Чан гIакъил вугев гIабдалассул малълъалда гъоркь! 15. Чан гIалимассул гIелму мискинлъиялълъ каранда жаниб ххутIараб! 16. Чан жагьилав гIабдал боцIцIуцца жаниве вачарав! 17. Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасса чи тIурулеб, чан зарараб жо бугеб, жиб тун чи вукIунареб. 18. Чанаре рачиналде гьаби кваназаруларел. 19. Чанахъанассул гьан биццатаб, гьабигьанассул чед биццатаб. 20. Чанахъанассул пишаялда баракат букIунареб. 21. Чангит барабщинаб чу букIунаро, чухъа ретIанщинав чи вукIунаро. 22. Чанго бихьичIого, рохьобе туманкI (ГIила гьечIого чияда гIайиб чIваге). 23. Чание мегIер лълъикIаб, чодуе авлахъ лълъикIаб. 24. Чанил бице чанахъанассе, чол бице чотIахъанассе. 25. Чаницца кьуру тун буго. 26. ЧанцIцIул борцаниги, хIамил рачIалда цого натIила. 27. Чара хвани, лочноцца гъадилгун чан гьабула. 28. Чаран къвакIула бацIанагIан, бахIарчиясс къо хIехьола хIал цIцIикIкIанагIан. 29. Чаран мугъалде ккун буго. 30. Чаранги биунеб, цIел хIал батани, гамущги меххтулеб, гIемер гьекъани. 31. Чаргъеду парххунилан, бакъул нур ссвинаро. 32. Чарухъаз гьабун, чакмабаз кваналеб заман бачIун буго. 33. Чахъаби ругони, вехь камиларо. 34. Чахъабиги цIунун, бацIалги гIорцIцIун. 35. Чахъдал къинлъиялдасса куйдул багьлъи бергьунеб. 36. Чахъдал тIом ретIараб чакъал гIемераб. 37. Чахъдал цIцIолъи бихьидал, цIцIе белъарабила. 38. Чахъдацца цIцIараб цIцIеде бачунге. 39. Чахъу гIорцIцIулареб, гIорцIен къинлъулареб. 40. Чахъу чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги багIарабила. 41. Чванта тIадагьлъани, гьудулзаби дагьлъулел. 42. Чвантида кIулал рарав. 43. Чвантиниб гIарац бугони, магIардаги ах гьабулеб. 44. Чвантиниб гIарац бугони, эбелалълъул къвалакьа яхъунги, яс кьолейила. 45. Чвантиниб гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIащтIи кодоб гьечIого, рохьове инго лълъикIаб. 46. Чвантиниб месед бугони, росулI яс камуларо. 47. Чваххулеб лълъадае нух камулареб. 48. Чваххун балеб цIцIад гIадав, щун бачIунеб гIор гIадав. 49. Черхх херлъаниги, ракI херлъулареб. 50. Черххалда гIакъуба бихьичIони, чехьалда рахIат бихьулареб. 51. Черххалда ракI чIчIоге, чи данде ккезе гурин! 52. Черххалда хIур бахинчIони, хIарччида нах бахунареб. 53. Черххалдасса гIорцIцIуге, къуваталдасса чIухIуге. 54. Черххалълъул цIцIайи цIцIадирабаз бицуна, чилъиялълъул цIцIайи мацIцIалълъ бицуна. 55. Чехь бакъарав, рукъ мискинав – умумузул къо-ассалдаса чIухIарав. 56. Чехь бакъунилан, рукъи балареб. 57. Чехь бухIуларессде рекIел ургъел бикьуге. 58. Чехь бухIун гIодани, беццаб бадиссаги магIу бачIунеб. 59. Чехь бухIун ракIалда ккураб жо киданиги кIочонареб. 60. Чехь гIорцIцIаниги, бер гIорцIцIуларев. 61. Чехь гIорцIцIарав – бер бакъарав, рукъ бечедав – ракI мискинав. 62. Чехь квешай кIалалълъе ккогеги, кIал квешай мадугьалихъе ккогеги. 63. Чехь квешасс рукъги бичулеб, ракI квешасс боги бичулеб. 64. Чехь сабаблъун бетIер ссуризе тогейила. 65. Чехь сабаблъун бетIер хварав бетIеркъотI. 66. Чехь цIезегIан кванаялълъ кIкIухIаллъи тIад гьабулеб. 67. Чехь чIвалеб жо – квен, черхх чIвалеб жо – рахIат. 68. Чехьалда рихараб жо нус гурони гьечIебила. 69. Чехьалълъ бетIер какарав бетIеркъотI. 70. Чехьалъеги черххалъеги бокьанщинаб гьабуни, чи бокьове ккола. 71. Чи вихьун, квен кьурал, чу бихьун, хер кьурал. 72. Чи вихьун, чухъа гьабе, гьудул вихьун, ракI рагье. 73. Чи вуххуге – малълъе, чу буххуге – кIалцIи бай. 74. Чи гурессда гьаруге, дурго хIурмат хунгутIизе. 75. Чи гьечIелълъув гIакъиллъун вукIиналдасса гIадамазда гъорлI гIабдаллъун вукIинго лълъикIила. 76. Чи гIемер – чи дагь, чу гIемер – чи дагь (Нагагь гурони, чу батуларо, надир гурони, чи ватуларо). 77. Чи гIемералълъуб гIакълу цIцIикIкIараб. 78. Чи гIемерлъани, гIадлу холеб. 79. Чи даражаялде, захIмат бихьун, вахунев, гIодове бигьаго кколев. 80. Чи къварид гьавурав воххун ххутIуларев. 81. Чи лъала рагIудассан, чу лъала рилълъадассан. 82. Чи лъазе бокьани, гьессие хIакимлъи кьейила. 83. Чи лъазе бокьани, гьессул гьалмагъассухъ ралагьейила (Чи лъазе бокьан, гьудул цIеххе). 84. Чи лъалилан абуге, лъороб гьецIцIо батизе гурин. 85. Чи чохьоццайила мискин гьавулев. 86. Чи хвезе бегьулев жинда чилъун вихьуларев чияссдассанги, чи хвезе бегьулев жинда жолъун бихьулареб унтиялдассанги. 87. Чи чIваларилан кьалги гьабуге, чу ссвакаларилан ахIудги рахъунге. 88. Чи чIван, балагьги бачIунгеги, чияда ццере къулизе ккарал къоялги рачIунгеги. 89. Чидай хIелиялдасса вакъи рекъон букIуна, яхI тун хьвадиялдасса къадру рекъон бихьула. 90. Чилъун лIугьине гIумруги дагьаб. 91. Чилъун лIугьинеялдасса гІалимчилъун вахъине бигьаябила. 92. Чини лъалин, ракI лълъида бихьулеб? 93. Чирахъ баканиги, чIчIужугIадан гьечIеб рукъалда нур букIунаребила. 94. Чирахъ гьечIеб рукъ – хIайван гьечIеб бокь. 95. Чирахъул канлъи гIоларессе бакъул канлъиги гIолареб. 96. Чияда базе бигьаяб жойила зигара. 97. Чияда бицараб жо – росдадаго лъараб жо. 98. Чияда божараб карщ лълъамияб букIуна. 99. Чияда велъуге, дудаго бадибчIвай бихьизе гурин. 100. Чияда гьардоге, дуццаго гьабе, гIедегIуге, лълъикI гьабе. 101. Чияда гьикъарав – гIакъил, гIакъилассда нахъвилълъарав – цIцIодор. 102. Чияда гьикъаралълъе дуцца жаваб кьоге - «ГьикъичIогобиц», – ан дудаго цIцIар лъолеб. 103. Чияда зигара базе инчIев жиндирго къварилъигун ххутIулев. 104. Чияда кверщел гьабизе лIугьарав лълъиего вокьуларевила. 105. Чияда ццебе хъат кквеялдасса хъирул къоно тIад байго лълъикIаб. 106. Чияда ццебе хъат ккурасс черхх бичула, чияе наку чIварасс намус бичула. 107. Чияда – цедер, дудаго – рокьо. 108. Чиядасса тIокIлъарассул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар бугев ххашазе тушманлъула. 109. Чияде абулелълъул, дурго эбелалълъулги пикру гьабе. 110. Чияде хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб. 111. Чияе бухъаралълъуре нилIго кколел. 112. Чияе гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек. 113. Чияе гьересси бицарасс дуеги бицунеб, чияе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб. Искандар Зулкъарнайидаги Дарвануш абулев хханассдаги гьоркьор ккаралила кIикъого къоялълъ гьоркьосса къотIичIел роркьарал рагъал. Дандеяссул къуват цIцIикIкIараб меххалълъ, Искандар хIилаялълъе ургъизе ккаравила. Искандарицца, цIцIикIкIараб къадар гIарац-месед кьезе къотIиги гьабун, Дарванушил кквезе щварав божарав гьалмагъ тIамуравила гьессда хвалил ругънал лъезе. Боги биххун гъоркь ххутIарав Дарвануш хханассда Искандарицца абурабила - «Рецц Аллагьассе, дир квердассан гурев, дурго бищун божарав гьалмагъассул квердассан мун холев вукIин!». Дарванушица абурабила - «Дун дуда тIасса лIугьана, лълъикIав бахIарчи, диени ххиянат гьабурасс дуеги ххиянат гьабизе бугебхха!». ГьебсагIаталълъго Искандарицца ххиянатчи гьессул хханассда ццевеги вачун чIваравила. 114. Чияе ккараб къварилъиялдасса воххарав ххалат воххун ххутIуларев. 115. Чияе нассихIат гьабун, дуццаго мунагь гьабуге. 116. Чияе рагIи бицунге, бицун ххадуб хвезе тоге. 117. Чияе хвел гьаричIого, дуего гIумру гьаре. 118. Чияеги гьабе, дуего гьабизеги кIочон тоге. 119. Чиякъасс ургъел катиде бикьулеб, вехьасс ургъел гьойде бикьулеб. 120. Чиякълъиялдасса чадикълъи лълъикIаб. 121. Чиякълъун чи ххутIугеги. 122. Чиякьа мунго къезе ххиянат гьабуге. 123. Чиякье кIалги ккоге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гьоркьоссанги раккуге. 124. Чияр бадибе унеб рас бихьулев, жиндирго бадибе унеб чIалу бихьуларев. 125. Чияр бакI бихьичIого, нилIералълъулго къимат лъалареб. 126. Чияр бакIалде араб лочнол нилIерго бакIалда бугеб гъадилгIан къимат букIунареб. 127. Чияр бахъухъалдасса нилIерго ххинкI лълъикIабила. 128. Чияр бихьизе – канав, жиндирго бихьизе – беццав. 129. Чияр бицин буго чияр гьан кванай. 130. Чияр бициналде дургоги пикру гьабе. 131. Чияр боцIцIиялда баххиллъизе бегьулареб. 132. Чияр боцIцIутIа бер биххуге. 133. Чияр васассдасса нилIерго яс лълъикI. 134. Чияр гьанадасса нилIерго гьуэр лълъикIаб. 135. Чияр гьорохъе кьурдуге. 136. Чияр гIадалI къараб чIор – гIеркъилI къараб чIор. 137. Чияр гIайиб ккола бачIараб балагь, нилIер гIайиб ккола бачараб балагь. 138. Чияр гIайибал рицунелълъул, мукъулукъ гIатIидав, жиндирго гIайибал рицунелълъул, гIундул раххчулев. 139. Чияр гIакълу босулареб бетIералдассаги цIунаги, бетIер гьечIей чIчIужуялдассаги цIунаги. 140. Чияр гIачIар какилалде, нилIерго басидулги багьа гьабе. 141. Чияр жо бикъарассул квер цIцIогьорабила, чияр жо ккурассул кверги кIалги цIцIогьорабила. 142. Чияр жо чияе те. 143. Чияр квен гьуинав, чвантил кIал къваридав. 144. Чияр квен гьуинлъугеги, чияр рукъ гьуинлъугеги. 145. Чияр кверацца мичIчI бетIизе бигьаяб жойила. 146. Чияр квеш бихьараб тезе кIваги. 147. Чияр кумекалде хьул лъоге, хIалтIун балагье. 148. Чияр куц-бегIалълъул бициналде цин матIуялълъуве валагье. 149. Чияр къварилъи жиндего бачIиндалила бичIчIулеб. 150. ЧIияр къимат гьабуларесс жиндиргоги гьабулареб. 151. Чияр кIиго шагьи ккурав чияссул багьа – кIиго кепек. 152. Чияр мажгиталълъуб как ахIулареб. 153. Чияр маслихIаталълъ росс-лълъади рекъон чIчIоларо, гъоркьагьобоги тIассагьобоги гIадин, цоцалI ххенон, жалго рекъон ккани гурони. 154. Чияр мегеж кквелалде, дургояб къунцIейила. 155. Чияр нахуде хьул лъун, нахударахъал гьаруге. 156. Чияр оц кваналевилан дирго ссан кваналев ватана. 157. Чияр рагIи – тIохде балеб цIцIад (РагIи – къватIиб, дун – рокъов). 158. Чияр ракьалда хханлъун вукIинегIан, нилIерго ракьалда узденлъун вукIинго лълъикI. 159. Чияр ракьалда чи беццав. 160. Чияр ракI релъиледухъ, накуги чIваге, чи чилъун вихьичIого, гьаваялдеги вахунге. 161. Чияр ригьиналда гьоркьове, гIабдал гурони, лIугьунаревила. 162. Чияр риди рахьилан ккогеги, рагьтIа гIака гьечIого ххутIугеги. 163. Чияр рокъоб квен тIагIамабила. 164. Чияр рокъов вугониги, чи лъала, чияда гъоркь бугониги, чу лъала. 165. Чияр рокъов дегIенлъунги вукIунге, дурго рокъов цIцIелъунги вукIунге. 166. Чияр ролIул чедалдасса нилIерго мочол гурга лълъикIаб. 167. Чияр ссадакъаялде саххаватго хьвадулев, жинццаго къватIибеххун къараб гурга кьоларев. 168. Чияр ссурукъ бихьараб дуццаго гьабуге. 169. Чияр тIагъур бахъани, нилIерабго къвалакь кквезе ккола. 170. Чияр хурибе рак баге. 171. Чияр цIакъалдасса нилIерго къадараб лълъикIаб. 172. Чияр цIцIоб батуларо, лълъадал нах бахъуларо. 173. Чияр цIцIоб – лълъадал щар. 174. Чияр цIцIобалде ккогеги. 175. Чияр чода рекIарав ххеххго рещтIуневила. 176. Чияр чода рекIарав хIарщукъотIнов рещтIунев. 177. Чияр чороклъи бихьизабулеб килищ бацIцIадаб букIине ккола. 178. Чияр чурпадулIе цIцIам жинццаго тIамизе те. 179. Чияр чIчIужу берцинайила, чияр чу цIакъабила. 180. Чияраб ссурун бихьун, нилIго кантIаги. 181. Чияралда бер биххарав, жиндирабго цагъриниб лъурав. 182. Чияралда хъваге, дурабго цIуне. 183. Чияразул бицунаго, дургоязулги пикру гьабе. 184. Чияргун гIахьалаб гIаладай, дунго бетIергьанаб хIамадай? 185. Чиясс дуе лълъикIлъи гьабуниги, квешлъи гьабуниги, гьелда нахъа цо гъваца батулебила. 186. Чиясс чи кIодо гьавуни, кIиялго кIодолъулел; чиясс чи инжит гьавуни, кIиялго инжилъулел. 187. Чияссда рекъаралила ишалги рукІунел. 188. Чияссдасса гьессул рагIад ххалатабила, гьессул гьунаралдасса рецц-бакъ борххатабила. 189. Чияссе гьабураб лълъикIлъиялдасса кIудияб ссадакъа гьечIебила. 190. Чияссе – гIамал берцинлъи, къохьое – нах, ратIлие – цIуни. 191. Чияссе – рагIи, хIамие – тIил. 192. Чияссе ссундулго гIей гьечIебила. 193. Чияссул бахIарчилъи борохь чIвазеги къваригIунеб. 194. Чияссул бахIарчилъи – ссабру гьабизе кIвей. 195. Чияссул чилъи жиндирго хъатикь букIунеб. 196. Чияссул гIамал хIакимлъун ккедалила лъалеб. 197. Чияссул ияхI – носол бал гIадаб жо. 198. Чияссул квешаб гIамал бахунеб унтиялдасса квешаб. 199. Чияссул къунтIаб гIамал-ххассият цо рагIудассанги бичIчIулеб. 200. Чияссул кьучIлъи – рагIи, рагIул кьучIлъи – тIубай. 201. Чияссул кIодолъи рарал соназулI гуребила букIунеб, гIакълуялълъулIила. 202. Чияссул хвел чияда бараб гьечIеб. 203. Чияссул хвелгицин берцинаб букIине ккола. 204. Чияссул тушманила жиндаго лъалареб жо. 205. Чияхъе тIагIел кьезе рокъотел виччай. 206. Чияцца гьабичIелълъул бициналде, дуццаго гьабуралълъулги багьа гьабе. 207. Чияцца гьабуралълъе къимат кьезе цIакъ бигьаяб жойила. 208. Чияцца гьабуралълъул гурони, жинццаго гьабуралълъул рогьо букIунарев. 209. Чияцца гьавун, чи лIугьунарев, жинццаго живго лIугьинавизе кколев. 210. Чияцца гьумер бухIизегIан, цIадуцца мегеж чIурхIаги. 211. Чияцца гIакълу малълъун, гIабдал цIцIодорлъуларо. 212. Чияцца кьураб бищунго лълъикIаб жо – гьáричIого кьураб жо. 213. Чияцца кьураб жа гьекъеялдасса живго бетIергьанаб лълъадал рагI гьекъей лълъикIаб. 214. Чияцца чи инжит гьавуларо, цин жинццаго живго инжит гьавичIони. 215. Чияццаниги кваналел Хъилидал багIаргIечал нилIеццаго кванан лълъикIила. 216. Чода рекъаралила тIукъбиги чIвалел. 217. Чода чIвалел магIазул гъанссида чIвалел магIал гьарурав Аллагь! Маххукъебедассул йикIун йиго цIакъ берцинай чIчIужу. Хханассе бокьун буго, гьелълъул россги тIагIинавун, жинццаго гьелдассан кеп босизе. Хханасс лъазабун буго къебедассда, метер радалалде нусго чодуе тIикъва-магI къотIичIони, жинцца мун чIвазе вугилан. Маххукъебедасс рокьукъаб ххабар чIчIужуялълъе бицун буго, кIвелародай рухI ххвассар гьабизеян хIалтIизе къассдги гьабун буго. ГIакъилай чIчIужуялълъ гьессда абун буго - дудассан тIалаб гьабулеб буго инсанассухъан гьабун бажарулареб жо. РачIа, къасси нилI регилин, метералде щиб бугониги ккелеб батила. Цониги магIги къотIичIого, росс-лълъади регун руго. Радакь, нуцIцIидаги тункун, хханассул нукарасс абун буго - «Ххан хун вуго, ххеххго гьессул гъанссида чIвазе магIал къотIизе тIаде вахъа», – ян. Маххукъебедасс гьурмада квер бахъун буго, ццереххун реххссарал рагIабиги абулаго, гъанссида чIвазе магIалги гьарун руго. 218. Чодасса гьоко ццебе унеб. 219. Чодасса рещтIун, хIамида рекIун. 220. Чодуе – цIцIал, хIамие – хIенссеркIо. 221. Чое – кьили, хIамие – гъалдибер. 222. Чое хъулухъ гьабичIони, лъелго рилълъине ккола, хIама лълъикI хьихьичIони, рохь мугъалълъ баччизе ккола. 223. Чол жал кколебилан, хIамил рачIчI ккоге. 224. Чол къимат лъаларев лъелго вилълъине кколев. 225. Чол хIал, гъогъолIе бачани, лъала, чияссул хIал, сапаралде цадахъ ккани, лъала. 226. Чордезе бокьарав лълъекьа хIинкъуларев, хIалтIи бокьулев бокьун вегуларев. 227. Чорххое рахIат гIемер гьабурав нахъа воххуларо. 228. Чорххол гьава цIцIикIкIарав цо хIалалда ххутIуларо. 229. Чорххол гIамал хисугеги, рекIел гIадлу биххугеги. 230. Чорххол гIамал хисугеги, хурул талихI бекугеги. 231. Чорххол сахлъи бараб буго роццада кванаялда, рукъалълъул ракIа-раххари – босаралълъуб босараб лъеялда. 232. Чорххол тIабигIат буго, керен тIуни, батIалъун чIчIолеб, тIечIони, кидаго хахулеб лъимер гIадаб жо. 233. ЧорххолI бугонани, нилIерго рухIги, махIалда бугони, нилIерго хIалги. 234. ЧорххолI бугони – рухI, чвантиниб бугони – гIарац. 235. ЧорххолI бугони – хIал, рокъоб бугони – махIал. 236. ЧорххолI витIарассе кинабго квен татуяб. 237. ЧорххолI витIи гIадаб чода чи рекIунарев. 238. ЧорххолI гьечIеб гьунаралълъ чи ццеве тIун инаро. 239. ЧотIахъанасс чу беццулеб, векьарухъанасс оц беццулеб. 240. Чохьое ияхI гьечIев, ракъуе ссабру гьечIев. 241. Чохьоеги рихьиеги бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколел. 242. Чохьол бухIиялда щибго релълъунареб. 243. Чохьол гурони, мацIцI лъаларев, чадил гурони, бицунарев. 244. Чохьол гьудулзаби чанги ратулел, къваригIиндал гьудул дагьав ватулев. 245. Чохьол дару – гьан, гьанал дару – рокьи. 246. Чохьол унти тIад чIвани, ботIрол унти тIагIуна. 247. Чохьол ургъел гьабуларесс ботIролги гьабулареб. 248. Чохьониб гьунареб кIалдибги гьунареб. 249. Чохьоцца гIадин, чи реххуларо. 250. Чоцца хIатIал росулел, тIад рекIарассухъ ралагьун (Чоцца юргъаги бачунеб, чи вихьун). 251. Чоцца чал кIанцIидал, оцоеги баркала кье. 252. Чоцца чи хIурулI речIчIулев, гIорцIмацца гъогъолI речIчIулев. 253. Чу берцин гьабула кьилиялълъ, чи берцин гьавула захIматалълъ. 254. Чу щведал, кьили щвечIо, кьили щведал, чу щвечIо. 255. Чу беэдун квегъе, чIчIужу еццун куцай (Чу беэде, чIчIужу ецце). 256. Чу босе гьод къокъаб, гьалмагъ ккве калам дагьав. 257. Чу босе, юргъа бихьун, налъи гьабе, чи вихьун. 258. Чу босулесс гьелълъул рилълъин цIеххедал, чол бетIергьанасс абурабила мавлидалде ахIун унев дибирассулалдасса ххеххаб бугилан. 259. Чу гьечIелълъуб хIамаги чуйилан толебила (тейила) 260. Чу, кIалдиб ххер ккун, холеб, къарум, дунялалда ххутIанщиналда ххадув ххачадулаго, холев. 261. Чу лъала, кьолокье ккедал, чи лъала, кьалде ккедал. 262. Чу лълъикIаб чияцца рекIинчIеб, лълъади лълъикIай чияе инчIей. 263. Чу лълъикIасс чодуе хIалхьи толареб, ретIел лълъикIав хьвадулев чIчIоларев. 264. Чу рилълъадассан лъала, чи рагIудассан лъала. 265. Чу хIалае ккун, хIамие кIалцIи щварабила. 266. Чу щолаго, гIорцIен гIабдаласс гурони рекIунареб. 267. Чу щолебги букIун, хIамихъ анищ гьабуге. 268. Чу-ярагъ лълъикIавилан, лълъиданиги цIцIар лъоге, лъалабалъги ратулел тадбир бугел гIадамал. 269. Чуги чIвачIого, чиги чIвачIого, хъала бахъулареб. 270. Чуги ццебе тун, лъалкI балагьулев. 271. Чуги цIцIалги гIола гIолохъанчияссе. 272. Чудкие балкан кинаб бугониги батIалъи букIунареб. 273. Чундузул убуразулI лIар биццатаб бис гIадав, лъарал лълъимазда гьоркьов хъахIилаб ралъад гIадав. 274. Чури бухIараб бахIри гIадин. 275. Чурпадул хIал гъодода лъала. 276. Чурул росода чIван, чIулгIи бекуге (Чи гурев чияссе кьун, лълъикIай яс хвезаюге). 277. ЧурулIа бахъараб гIункIкI гIадин. 278. Чурунилан щагIил чини лIугьинаро, чол русснада бухьунилан, хIамил чу лIугьинаро. 279. Чухъида квер бахъула, хъабчиде квер хьвагIула. 280. Чуял гIемер руго – тулпар цо буго, гIадамал гIемер руго – бахIарчи цо вуго.
- chhchh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
С s 1. Сабаб тIагIараб жо – гIажал, гIадан холеб жо – ххиял. 2. Саву кьарияб, кьаву хIалакъаб. 3. Саву кьун, кьаву босуге. 4. СагърикьотIа гьабураб ГьимагIурухъ батулеб. 5. СагIат гьечIеб рукъ – гIака гьечIеб бокь. 6. СагIат гьечIев беццав, рузнама гьечIев рекъав. 7. СагIаталълъул гIадлу соналълъул гIибадаталдасса лълъикIаб. 8. СагIатгIан ххалатабги букIунебила къо, лъагIелгIан ххалатабги букIунебила. 9. Сайигъат бачIарав – таххида, бачIинчIев – туртида. 10. Сайигъаталълъе кьоло-гъолон чу щварасс цадахъ ярагъги щай гьечIебилан абурабила. 11. «Салам гIалайкумалълъ» гIи гъурараб, апарагасс росу хвараб. 12. Саламалда рекъарабила жавабги букIунеб. 13. Сапаралдасса, гамачI босунги, чIорого рачIунгейила. 14. Сапаралде вахъунесс хъабарча рокъоб тоге. 15. Сапарцадахъ лъазе бокьани, гьессул хьитинибе чIимихх реххейила. 16. Сапнацца чурунилан чIчIегIерцIцIвак хъахIлъиларо. 17. Сариси гуреб букIун бугеб, тIатIи букIун буго (ХIамида оххцер квине щибила лъалеб). 18. Сардил ххалалъи лъалеб унтарассда, къойил ххалалъи лъалеб вакъарассда. 19. Сасу бекуларо, кун тIечIелдасса. 20. Сасу кьун, рукIкIен кьунила рокьи гьабулеб. 21. Сахаб гьой гважуда тIад речIчIулареб. 22. Сахав бахIарчияссе нусго гьунарги дагьаб. 23. Саххаватасс мусру чиядаги балебила, къарумасс жиндаго барабги кIкIунебила. 24. Сахлъи бокьани, бетIер гьогьмада, хIатIал ххинлъуда, чехь бакъун хьихьейила. Кибего цIцIар рагIарав тоххтир вукIаравила. ГIадамаз гьессда абулеб букIарабила, Аллагьассул къадаралде щоларев чиги вукIанарин, дуцца дурго устарлъиялълъул балъголъи, цадахъ босичIого, ххадур рачIунезе цIунун щайин толареб. Гьессги абулеб букIарабила, жинцца гьеб цадахъ босиларин, жив хун ххадуб, жиндир гъанссинире раккейин, гьениб батилин нужеда жиндир гьунаралълъул балъголъи хъвараб тIехь. Хванила тоххтир. Ракканила гьессул гъанссинире. Батанила гьениб цIакъ щулаго бухьа-къараб жо. Цо бечедав чиясс, ирсилаз абураб багьаги кьун, босарабила гьеб. Бихха-бичараб меххалълъ гьениб батарабила тIехь. Гьелълъул тIоццебессеб гьумералда ратаралила кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби, цогидал гьурмазда щибго хъван батичIебила. 25. Сахлъи букIаго, хIалтIи гьабе, черхх букIаго, ретIел ретIе. 26. Сахлъи гьечIеб унтудассаги нагагьаб балагьалдассаги цIунаги. 27. Сахлъи гьечIев хханассдасса сахлъи бугев лагъго талихIавила. 28. Сахлъи гьечIессе бечелъи щай? 29. Сахлъиги кьун, унти босарав. 30. Сег кванараб чода канлъи бихьулареб, бечелъараб меххалълъ чияссда чияр гIакълу берцин бихьулареб. 31. СихIираб гьимиялдасаги цIунаги, гьуинаб реццалдассаги цIунаги. 32. СихIирав гIабдал. 33. СихIирав чияссулгун даранги гьабуге, гIантав чияссулгун оцги баге. 34. Сордо базаеян гъотIода рещтIараб гъеду гIумруялълъго гьениб ххутIун рагIула. 35. Сордо бачIунареб къо букIунареб. 36. Сордо бецIцIаб бугогIан, цIцIваби гвангъун рукIуна. 37. Сордо къватIиб – ххинкI рокъоб. 38. Сордо сардие те. 39. Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна. 40. Сордо-къо цIцIикIкIарассул гIакълу цIцIикIкIараб. 41. Суалалда рекъон, къокъ гьабун, кье жаваб. 42. Сумал чIалу гьабуге, гьалил михир гьабуге. 43. Сумалда сум лъуни, гул лIугьунеб. 44. Сусур цIцIикIкIаралълъуб бугIа дагьаб, рагIи гIемералълъуб гIакълу дагьаб. 45. Сусур чIаралаго, ролIул чIорал гьоркьоре ккунги ратулел, гIакайилан ккун, хIама бечIчIулелги ратулел.
- tsts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Р r 1. Рагъ ккараб меххалълъ гуребила ярагъ хIадурулеб, рагъ ккелалдейила. 2. Рагъалдасса рекъел лълъикIаб. 3. Рагъалълъ вас гьавуларо, гьавурав чIван гурони. 4. Рагъалълъ къед баларо, бараб биххун гурони. 5. Рагъда щив бергьаравали, рагъ лIугIидал лъала, чIчIужуялълъ васищ гьавилевали, къинлъидал лъала. 6. Рагъде вахъиналде мунгоги лъай, дурго тушманассул къуватги лъай. 7. Рагъде лIутизе гурелила унел, рагъизейила. КIийидеги рекъав цо рагъухъан рагъде унев вукIанила. Данде ккарасс гьессда абунила, - Ле талихIкъад! ЛIутизе ккани, дуцца щиб гьабилеб? Бищун ццеве ххадув гъурасс чIван реххила гури мун! - Рагъде лIутизе гуро унел, рагъизеги бергьинеги уна! – ян жаваб кьунила рекъав рагъухъанасс. 8. Рагъидаго – бакъ, къотIнобго – мажгит. 9. Рагъулебги гIадат, рекъолебги гIадат. 10. Рагъун рихьунила белехь рекъарал. 11. Рагьуге ракI, рагьани, къаге. 12. РагьумахIугIан бегизе захIматаб мегIер гьечIеб. 13. РагIабаз гуребила калам берцин гьабулеб, магIнаялълъила. 14. РагIал бахъараб, ракьан бахъичIеб каламалдасса цIунаги. 15. РагIал бахъун, хур бекье, ракьан бахъун, бокь хъващтIе. 16. РагIал гьечIеб майдан букIунареб. 17. РагIалалдасса ракьан лълъикIаб. 18. РагIанщинаб бицаравги – гьерссихъан, бихьанщинаб бицаравги – мацIцIихъан. 19. РагIанщинаб бицинги мунагьила. 20. РагIанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб. 21. РагIарав нусго нугIассдасса бихьарав цо нугIго лълъикIавила. 22. РагIаралдасса бихьараб битIараб. 23. РагIи абилалде лъабцIцIул ботIрониб ссверизабейила. 24. РагIи бадибе лълъикIаб, тIил мугъалде лълъикIаб. 25. РагIи бакI бихьунила абизе кколеб. 26. РагIи баччуларесс зар баччулеб. 27. РагIи бице, бакI бихьун, ургъел бикье, чи вихьун. 28. РагIи бице, магIна бугеб, кици тIаме, гогьар бугеб. 29. РагIи бугеб рукъалдасса магIу бугеб рукъго лълъикIаб. 30. РагIи гьабизе – нус, нису кваназе – яс. 31. РагIи гьабуларесс боцIцIи хьихьуларо. 32. РагIи гьечIони, кечI букIунареб, гамачI гьечIони, къед букIунареб. 33. РагIи гьорое биччалев Гьорол МухIума. 34. РагIи гьуинаб бицун, гьоло кунев бетIеркъотI! 35. РагIи гьуинассул гьудул гIемерав, кIал хъачIассул тушман гIемерав. 36. РагIи гIакъил – гIакълугьечI, гьури кIодо – пишагьечI. 37. РагIи гIемерав вакъарав, бугIа гIемерав гIорцIцIарав. 38. РагIи гIемерав «гIакъил» гIадамазда чIалгIуна, чIалгIаде гаргадулев ххалкъалдаго рихуна. 39. РагIи жаниб лъоларессда бицинегIан, квенчIчIел цIун къватIибе байго лълъикIила балъголъиялълъе. 40. РагIи къокъаб лълъикIабила, гIарщ ххалатаб лълъикIабила. 41. РагIи къокъал, къадар ххалатал ратаги. 42. РагIи кьара буго – кьей хIалакъ буго. 43. РагIи кьварараб бице, кьабизе ккани, лIута. 44. РагIи кьогейила, кьуни тIубазабейила. 45. РагIи кьучIчIав чи чодаги лъалев. 46. РагIи лъалев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодов. 47. РагIи лъалев гIабдалассдасса мацIцI лъаларев цIцIодор лълъикIав. 48. РагIи рагIуде бачIуна, гIор кьодукье бачIуна. 49. РагIи – рекIел кIул. 50. РагIи тIагIуна, тIолалго гIадамал хвараб меххалълъ, гIайиб тIагIуна, щивниги тIад кIалъачIого тараб меххалълъ. 51. РагIи ургъун бице, гали борцун тIаме. 52. РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме. 53. РагIи ххалат, ххабар къокъ. 54. РагIи хвани, чи холев. 55. РагIи хварав чи – живго хварав чи. 56. РагIи холев чияссулгун гьудуллъиги гьабуге, холарев реххунги тоге. 57. РагIи-ххочI ххалатассул ххиянат камулареб. 58. РагIи ххалеб хадиро, ххараб цIцIалкIулеб цIцIалкIу (ххараб чIчIикIулеб чIукIна). 59. РагIи хIалакъаб бице, гьан кьарияб кванай. 60. РагIи – ццебессан, тIил – нахъассан. 61. РагIи цIцIалкIулеб цIцIалкIу, цIцIад кколареб буртина. 62. РагIи цIеххоге, хIалтIи цIеххе. 63. РагIи цIцIикIкIиналдасса чIагIа цIцIекIлъиго лълъикIила. 64. РагIи чол багьаяв – живго чахъдал багьаяв. 65. РагIи чIчIедал – гIакъил, кьалда бергьиндал – багьадур. 66. РагIиги кьун, тIубачIого теялдасса, рагIи кьечIого тезе бигьаябила. 67. РагIизе бокьулареб жо рагIулареб. 68. РагIиялълъ гIадан лъала, гIамал бихьун реххссола. 69. РагIуд гIорцIцIиги тIоход вакъиги – цого жо. 70. РагIуд ракъаги, богIод гIорцIцIаги. 71. РагIуда божуге, хIалтIуда божа. 72. РагIуда куркьбал рукIунел (ца таралълъ мегIер толеб). 73. РагIуда ххадуб рагIийила. 74. РагIуда хIатIал гъурай, хIалтIуде нуцIцIа къарай. 75. РагIудаги хIалтIудаги гьоркьоб къол нухила. 76. РагIуе рагIи камулареб, яргъие ярагъ камулареб. 77. РагIукъавщинав гIинкъав вукIунарев. 78. РагIул гугьар гьечIин, гьурал жалго те. 79. РагIул гIомо гьабуге, гIабдалгун щагъадуге. 80. РагIул гIомоялълъул гIарщал гьаруге. 81. РагIул камитал кварасс керен ххачазе ккараб. 82. РагIул квешлъи – ххалалъи, ххарбил квешлъи – гIемерлъи. 83. РагIул кумек боцIцIул кумекалдасса кIудияб. 84. РагIул магIна бичIчIуларесс битIараб гьерессилъун, гьересси битIараблъун гьабулебила. 85. РагIул магIна бичIчIулеб, бакI бихьун. 86. РагIулI лълъикIлъиги букIунебила, гIажалги батулебила. 87. РагIулIе загьру жубаге. 88. РагIухъ ралагьуге, хIалтIухъ ралагье. 89. РагIуцца бахъулареб хъала букIунаребила. 90. РагIуцца гIадан лъала, даруялълъ тоххтир лъала. 91. РагIуцца лIукъулел, рагIуцца сахги гьарулел. 92. РагIуцца рагIи бахъула, чIагIдацца гIуп бахъула. 93. РагIуцца хур беэн гьабуларо, гьури-мучалълъ чIараларо. 94. Радал багIар – къинаб, къасси багIар – хIораб. 95. Радал барщани, къасси рекъолел нилIералго лълъикIила. 96. Радал бицараб къоркъое арай, къасси бицараб борхьие арай. 97. Радал вахъаравги гьитIинго чIчIужу ячаравги нахъа воххулев. 98. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб. Журай къинлъулеб заманалда цо-цо ягъзинав вехьасс, радалго вахъун, жиндирго лемагалда чияр цIцIуяб кьегIер босизабулеб букIун буго, чияралда жиндирго бихьинаб кьегIер босизабулеб букIун буго. Гьединаб хъублъиялда тIад бижараб гьаб кици жакъа хIалтIизабула радал вахъарассул хIалтIи лIугьуна, иш битIун ккола абураб магIнаялда. 99. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб, ццудун вахъарассул сахлъи лълъикIаб. 100. Радал вахъинчIессе къо къваридаб. 101. Радал вахъудасса гIадин къаркъалаги букIунаребила, чи ховудасса гIадин ракIги букIунаребила. 102. Радал вачIарав гьобол ххеххго унев. (Гьаниб гьобол ккола тIабигIат. Умумузул аби буго радал рачIарал накIкIал ххеххго нахъе унилан). 103. Радал кваначIого, къватIивеги вахъунге, къватIул ххарбал росун, рокъовеги вачIунге. 104. Радал къалъизегIан бугони щиб къолол магъало, къалъудасса нахъе бугони щиб росдал кIодолъи. 105. Радал - къалъизегIан къулгъу цIцIалулев, къалъудасса нахъе чагъир гьекъолев. 106. Радал - къалъизегIан къуръан цIцIалулев, къалъудасса нахъе хIамул рикъулев. 107. Радал – къватIиве, къасси – жаниве. 108. Радал – рохьдолIе, къасси – бокьобе. 109. Радал роцIцIун, къалъуда кьерхун. 110. Радал яхъаралълъул балъ тIокIаб. 111. Радалги къассиги квен россассул бугони, къадеквенгIаги чIчIужуялълъулги букIине кколеб. 112. Радалго гьабураб хIалтIи лълъикIаб, гьитIинго ячарай чIчIужу лълъикIай. 113. Радалисса мацIцIицца чанги чи мукIурлъулев, мацIцIида ракI рекъарав бакъ ун ххадусса лъалев. 114. Радалквен дуццаго кванай, къадеквен гьалмагъгун цадахъ кванай, къассиквен тушманассе кье. 115. Ражи мискинчияссул дандежойила. 116. Ражи тIагIиндал тIураб цIцIамулIин гIадав. – Ражи хху - ххун, ххинкIал квин дуццаги те, Ххарабат! – ХхинкIазда гIужал райи дуцаги те, хIалихьат! 117. Ражи цIцIоролеб моцIцIалълъ ЦIцIолода рохьовеги унге, цIцIани къинлъулI мундерил ахакьеги унге. 118. РажидулI анкьго дару букIунеб. 119. Разилъи гьечIого яс ригьнаде кьейги кIудияб мунагьила. 120. Разияб къоялълъ гIурусазул гьатIанкъо гIадав, пашманаб къоялълъ жугьутIазул шаматкъо гIадав (ВитIани – гьатIан, гьетIани – шамат). 121. Рак бараб хуриве Аллагь валагьунев, бечедаб рокъое яс ялагьулей. 122. Рак баралълъуб хIалухъин хIалигIараб букIуна. 123. Рак гьечIого, бокь бичуге, бекьичIого хур бичуге. 124. Рак хIаллъанагIан, хIалухъин гьарзалъулеб, кици гIемерлъанагIан, калам берцинлъулеб. 125. Рак чIвачIеб хуралдассаги цIунагийила, хур гьечIеб рукъалдассаги цIунагийила. 126. Рак чIвачIони, ракьалълъ пайда кьолареб, хъулухъ гьабичIони, ахикь пихъ бижулареб. 127. Раква гьетIунилан, гьобо хисулареб, гьобо бекунилан, раква хисулареб. 128. РакугохI хисунилан хъабхъал чIахIалъиларо. 129. Ракъдадаги вукIун гуребила ччугIа кколеб. 130. Ракъдада лIугьараб хIор ххеххгого къунебила. 131. Ракъи – хьул, кIвахI – ссвак. 132. Ракъугеги, гIорцIцIугеги, рахакь хваги. ПатихIа. 133. Ракъуда нич гьечIеб, бечелъиялълъе гIей гьечIеб. 134. Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани, рагIи гьуинлъула. 135. Ракъул къали кIутIугеги, къохьол тIажу ретIунгеги, чиякълъун чи ххутIугеги. 136. Ракъусоналълъ месед учузаб. 137. Ракъусоналълъ руцIцIун чIчIарал, гIорцIцIунсоналълъ релъанхъарал магIарулал. Ракъусоналълъ, хъабиниб бетIерги къан, годекIаниссан унеб гьойда щивго велъичIевила. Хур бачIараб соналълъ, гьебги ракIалде щун, киналго релъаралила. 138. Ракъусоналълъ эбел якъуцца хварайила, вас, чохьодасса ун, хваравила. 139. Ракь бижилалде, рак бижарабила, гIолохъанчи вижилалде, гьекъолеб жо бижарабила. 140. Ракь бухъани, месед батулебила, рагIи бухъани, гIажал батулебила. ВукIун вуго цо бечедав чи. БукIун буго гьессул кIудияб ахги гIатIидаб пастIан-къоноги. Кидаго гьесс кIиявго васассда абулеб букIун буго - “РакьулI месед бугебхха, дир лъимал, рагIулI гIажал бугеб. Ворехха, нужецца ракь гIемер бухъе, рагIи дагьабги бухъуге!” – ян. Жинцца ракьулI баххчараб щибниги жо гьечIого, инссуцца кидаго нилIеда гьадал рагIаби гIемер абилароанилан ракIалдеги ккун, кIиявго ваццасс ракь гIемер бухъулеб букIун буго. Месед-гIарац жинда-жинда батилародаян, цоцаздасса балъгоги хъирщадулел рукIун руго. КъотIун буго пайдаяб жо батиялдасса хьул. Реххун тун буго ваццаз ракь, ракьалълъ гьалги тун руго. Заманалдассан гьитIинав ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги кIудияв ваццассул хIелеко хъазлъун бихьун буго. КIудияв ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги ккун буго гъозул хъаз варанийилан. КIудияссухъе щун батилин дагьабниги меседилан гьитIинав, гьитIинаб гIонкIкIоцца гуккун ватилин живилан кIудияв, цоцаздеги шакдарун, рагIи бухъизе лIугьун руго. Руччабазги риччан руго рагIул ххалатал раххссал. Инссуцца меседилан ссунде абулеб букIарабали бичIчIичIел лъималазда рагIулI гIажал цIакъго кIудияб батун буго. 141. Ракь кинаб букIаниги, гьелълъ гурони нилI хьихьуларел. 142. Ракьа гьечIеб гьан букIунареб. 143. Ракьа гьечIеб гьанги хIе гьечIеб гьоцIцIоги букIунареб. 144. Ракьалда бихьичIониги, хIарам зобалда бихьулеб. 145. Ракьалдасса бер гIорцIцIулареб, гIарац тIассан чваххулареб. 146. Ракь-ракьалълъул гIадат батIияб, гIадамазул ххассиятги батIияб. 147. Ракьа бугони, гьан камиларо. 148. Ракьа бугониги гIолебила ГIандисса чое. 149. Ракьалдассан рижарал нилI ракьалде тIад руссуна. 150. Ракьалда тIадалдасса ххиянатчияссе ракьул чохьонибго лълъикIила. 151. Ракьул бетIергьан вуго ракь хIалтIизабурав чи. 152. Ракьул гIанкIкI ракьул гьойцца гурони кколареб. 153. РакьулI баххчаниги балагьулебила гьунаралълъ къватIибе нух. 154. РакьулIе ккараб мугь тIирщичIого ххутIулареб. 155. РакьулIе регьел – ракьулIан тIорщел. 156. РакьулIе рехханиги, месед холареб, хабалIе аниги, бахIарчи холарев. 157. Ракьуцца кваназавизе бокьарасс ракьги кваназабе. 158. РакI бахIарлъунилан, черхх цIилъуларо, Чорххол лугбузул гьан гур-гурун ххадуб, Горбол щекI цIцIабуцIцIун, мугъ битIуларо, Мугъзал гьод къулараб къо бачIун ххадуб. 159. РакI бащалъуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, чехь бащалъуларессулгун гьалмагълъиги гьабуге. 160. РакI бакъвани – Закил рукъ, ццим бахъани – Ххизрил рукъ. 161. РакI бащалъун квараб гурга лълъикIабила, мекъсса руссун квараб чадидасса. 162. РакI беццлъиялдасса бер беццлъи лълъикIаб. 163. РакI бечедассул рукъ мискинаб. 164. РакI битIизегIан, мацIцI битIулареб. 165. РакI бихьуларев гьудулассдасса берал рихьулев тущман лълъикIав. 166. РакI гурхIун, асскIобе бачараб бурутI, ццим бахъун, бачахъизе ккарабила. 167. РакI гIедегIарассе нух ххалатаб. 168. РакI квегъиялдасса черхх квегъи бигьаябила. 169. РакI къварилъи – херлъиялълъул бащалъи. 170. РакI кьерхарассе дунялги кьерлъун букIунеб. 171. РакI рагьуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, сапар хIехьолареб хIамагун нухдаги унге. 172. РакI херлъичIогойилан, къаркъала херлъичIого букIунареб. 173. РакI унтун гIодани, беццаб бадиссаги магIу баккулеб. 174. РакI херлъугеги, хоб билугеги. 175. РакI чIчIараб жо – гIайлан чед. 176. РакI щваралълъубе хIетIги щун. 177. РакI щулияссул черххги щулияб, ракI тамахассул черххги тамахаб. 178. РакIал гIатIидалълъуб бакIги гIатIидаб. 179. РакIалда бугеб жо бицинчIогойила нухъа чIчIегIерлъараб. 180. РакIалда бугебщинаб гьурщизе кколареб. 181. РакIалда гьечIеб мугъалда нахъа батугеги. 182. РакIалда къараб къватIибе реххичIого ххутIулареб. 183. РакIалдасса ххеххаб жоги гьечIеб, ххеххго хисулеб жоги гьечIеб. 184. РакIалълъ борце, гIакълуялълъ къотIе. 185. РакIалълъ пикру гьабичIони, канал бераздаги щибниги бихьулареб. 186. РакIалълъ хвел гьарулей, кIалалълъ сахлъи гьарулей. 187. РакIа-рахари гьечIезул къо, къваригIараб жо балагьулаго, унебила. 188. Ралъад гъваридабгIаги, гьелълъулги тIину бугеб, мегIер борххатабгIаги, гьелълъулги бетIер бугеб. 189. Ралъад лълъецца гIорцIцIулареб, боцIцIи гIун, чи холарев. 190. Ралъдадаги гел лъе, гIемер бугилан исрап гьабуге. 191. Ралъдаеги щуб къваригIунеб, щубаеги бакъ къваригIунеб (Ралъдаеги – щуб, щубаеги – бакъ). 192. Ралъдал карачелалда рекIинчIони, гьоцIцIо щоларо. 193. Ралъдал лълъималълъеги пасалъи бегьуларебила. 194. Ралъдал лълъим цIцIикIкIуна тIаде рачIунел гIораздалъун, тIадчияссул лъай цIцIикIкIуна чияцца бицунелълъухъ гIинтIамиялдалъун. 195. Ралъдал тIину гьечIеб, гIорцIмадул тIинчI гьечIеб. 196. РалъдалIе бохх биччан паххрулъарай мун, Ралъад къундай бугеб, мун къулун йигин. Меседил мали чIван зодой яхарай, Молол гIучI бекундай, гIодой чIван йигин. 197. РалъдалIе лълъимги баччуге, рохьобе тIилги босуге. 198. РалъдалIе реххараб рукIкIада ххадувги унге, хварав чияссде гIайибги реххуге. 199. Рас бижанагIанила гIункIкI бугьунеб, бечелъанагIанила чи бараххщулев. 200. Рас ххалалъунилан хханасс мун ячинаро. 201. Рас хIеренаб бихьунила хIанчIицца руз бетIулеб. 202. РатIа – биххаро, бохх – гIуцIцIаро. 203. Рател гьечIеб хIалтIи – меххтулареб чIагIа. 204. РатIалги щоларого, щигатги гIоларого. 205. РатIаялълъ гьоркьоблъи тIезабулеб, боххалълъ гIуцIцIулеб. 206. РатIлид вуцIцIарассул хIурмат кIудияб, тIагъур хIуларассухъ гIин тIамулареб. 207. РатIлие эххетарав тIоххое бегьуларев. 208. РатIлил исбагьилъи – гьарзалъи, чорххол исбагьилъи - ххалалъи. 209. РатIлихъ балагьун – дандчIвай, ххарбихъ балагьун – тIовитIи. 210. РатIлицца чийилан, чухъа ретIарав, чоцца багьадуран, ябу рекIарав. 211. РатIлицца – чи, чоцца – багьадур. 212. Рахакь хIебтIарав хIал ккедал къватIив чIвалев. 213. Рахал рикIкIунев гьечIев чиясс квеш вугилан абуге. 214. Рахараб гъамассги буцIцIараб кIалги – кIиябго бечедаб жо. 215. Рахен гьечIеб гIор букIунареб, нух гьечIеб мегIер букIунареб. 216. Рахен гьечIеб кьуру гьечIеб, рагIал гьечIеб авлахъ гьечIеб. 217. РахъдалI бугониги, чиниги лъала, чурулI бугониги, меседги лъала. 218. Рахь баккулареб гIакдае чури кьоге. 219. Рахь гьечIеб гIакдацца гIартилI мал бала. 220. Рахь гIемер унеб бугилан, гIункIкI къан цIцIурай, гIадада жо теларилан, хвараб гIака бечIчIарай. 221. Рахь кьолареб гIакдае чури кьоге, пайда бахунареб жоялълъе ххарж гьабуге. 222. Рахь хахулелълъул бече хIалакъаб. 223. РахьдалI рас ххеххго бихьулеб. 224. Рахь-нах бокьарасс гIака лълъикI хьихье (ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран). 225. РахIат гьечIеб хIалтIудассаги цIунаги, хIалтIи гьечIеб рахIаталдассаги цIунаги. – РахIат, хIажи, рахIат! – ан абурабила гIарабиясс варани цогидазулалда ххадуб гъезабеян абурав хIеж борххулев магIарулассда. РахIат букIуна дие, дир вараниялълъул бетIер цогидазулалда бащалъараб меххалълъ! – ан жаваб кьурабила магIарулассги. РахIатаб гIумру бокьани, дуццаго чияеги гьабуге налъи, чияда дуегоги гьабуге. РахIатал гьарзалъани, гIакълу гьечIев чIухIула, Балагьал тIаде щвани, ххеххгого къварилъула. 226. РахIаталълъе гIей гьечIеб, рокьуе гIурхъи гьечIеб. 227. РахIаталълъе гIей гьечIебила, боцIцIи гIун, гIаданги хвечIевила. 228. РахIаталълъе гIей гьечIилан, ГIакулицца бусен борлIарабила. 229. РахIатгун – хIалихьалъи, захIматгун – бахIарчилъи. 230. РацIцIалъи гьабулей гурейила яцIцIадай, рацIцIалъи цIунулейила. 231. РацIцIалъи – сахлъиялълъул бетIер, чороклъи – унтул гьудул. 232. РацIцIа-ракъалъи гьабизеялдасса цIунизе лъазе ккола. 233. РацIцIа-ракъалъи гьабулелълъуб гуребила букIунеб, цIунулелълъубила. 234. Рачараз лълъудби хьихьаги, гьарураз лъимал хьихьаги. 235. Рачелалълъ чехь къарав, чоцца гьан къарав. 236. Рачиде баче чаран. 237. Рач-рачаги, а-аги, ирга дидеги щваги. 238. Раччлиде гIи аралълъуссан хIатIида гIицIцIго ине ккаги. 239. Раччи бачче черххалда рекъараб, квен кванай чехьалда рекъараб. 240. РаччулI хIама къинлъугеги, хIалтIулI лълъади къинлъугеги. 241. РачIчI бухьун, хIама чIчIолареб (ХIамил рачIчI бухьун чIчIолареб). 242. РачIчI къотIун, борохь къелIе биччаге. 243. РачIчI кIудияб лIугьинейилан, дегIен хьихьун букIарабила, лIурдул кIудиял лIугьун, чехь бихъизе ккарабила. 244. РачIчI ххалатаб гьойги хьихьуге, гьод ххалатаб чуги босуге. 245. РачIчIалдасса чIухIараб хIелеко гIадин. 246. РачIен гьечIеб рукъ – охх унеб гьобо. 247. Ращалъи гьабунагIан, гьуинлъи (гьудуллъи) цIцIикIкIунеб. 248. Ращалъиялълъул асслу – ритIухълъи. 249. Регьел гIуралълъубе щуб гIолеб. 250. Регьел хIалалъуб чед кIудияб, чи хIалалълъуб хIалтIи кIудияб. 251. Регьелги ххинлъиги гIедалила гIодобе бортараб мугь тIирщалеб. 252. РегIараб меххалълъ гуребила кумек гьабулеб, къваригIараб меххалълъила. 253. РегIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге, херлъараб меххалълъ гьабилилан динги тоге. 254. РегIараб меххалълъ гьабилилан кумекги тоге, щвараб меххалълъ бецIилилан налъиги тоге. 255. «РегIуларо», «щоларо» гIилалъун рикIкIунаро. 256. РегIун гIумру аги, хIехьезе гIакълу кьеги. 257. Рекъав чияссул рагIад къокъаб букIуна. 258. Рекъараб гIамал ккурав гIадамазе вокьула. 259. Рекъараб рехъалълъ хъумур речIчIулареб. 260. Рекъасс къвал цIурабила, къокъасс магь баччарабила. 261. Рекъел бугила масслихIатчагIазул иш, цин ХIаригабурлъи бегейила. Яс уней йиго васассда ххадуй лIутун. Гьезие хIинкъи буго ахIуд бахъун бачIараб ясалълъул гIагарлъиялълъ жал чIваялълъул. Ясалълъ васассда абулеб буго, унго, умумул нилIеда тIассагIаги лIугьинародай, гьел нилIгун рекъезарулев чиго вукIинародайилан. Васасс ясалда абун буго, цин хIинкъи бугеб бакIалдасса рорчIилин, маслихIаталълъе чи камиларев ватилилан. Кициялълъул магIна буго - «Цин хIинкъиялдасса цIуне, ххадуссеб ххадуб гьабе», – ян абураб. 262. РекъечIеб бицарассда бокьулареб рагIулеб, ххвалчадул ругънадасса рагIул ругъун унтулеб. 263. РекъечIелълъуб кIал гъурай, кIваричIелълъуб бер гъурай. 264. Рекъолареб ганчIицца къед ссурукъ гьабула. 265. Рекъон кванай, къецц бан хIалтIе. 266. Рекъон хIалтIаразул хIалтIи гIемераб, рекъон ахIаразул бакъан рекъараб. 267. Рекъон чIчIикIаре. Жибго гьитIинаб «гIамал кIудияб» кIиго рагIиялдассан гIуцIцIараб гьаб кициялълъул гьайбатлъиги берцинлъиги! Вихьизе гьитIинав, гьунар кIудияв чияссде магIарулаз абула тIаде вугевгIанассев ракьулIеги вугев чийилан. НилI жиндасса чIухIизе бегьулеб гьаб кIиго рагIиялълъул кьалбал гъваридал руго. Гьалълъ бицуна цолъиялълъулI гуч букIиналълъулги, росдал газа кьурда рекIиналълъулги, кIиго бетIерги рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ бечелъиялълъул, инсаният рекъон хIалтIанагIан, кинабго рахъ ццебетIеялълъулги, бищунго инсанассе хIажатаб, рекIее рахIат бугеб, хIинкъи гьечIеб гIумруялълъулги. Гьелда тIад бижана - «Рекъон хIалтIанагIан цадахъаб магIишат бечедаб», – ан абураб цIияб кициги. 268. РекIараб чуялда кьурдарав дун, кьолочIеб гIорцIмада рекIарав мун. 269. РекIаралълъув рещтIаги, борчаралълъуб бичаги. 270. РекIарассда лъелав велъуларев. 271. РекIаразул бода гьабизе кIолареб гIакъилассул кIалалда гьабизе кIолеб. 272. РекIарассухъ ралагьун, рекIа, рещтIарассухъ ралагьун, рещтIа. 273. РекIеда балареб гьуриялдасса гьури-бакъ чIвалареб чIчIегIер ракьулI лълъикI! 274. РекIеда бараб хIапаро гIадав чи. 275. РекIеда кIулал рарав, кIалдиб килас кьабурав. 276. РекIеда тIатIи рекIарав мун, тIулида нацIцI барав дун. 277. РекIеда тIатIи рекIарав хIариколоссессда хIатIикь цIа бакарав кIахъияв вичIчIиларо. 278. РекIедасса рекIеде – кьо. 279. РекIее бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколев. 280. РекIее бокьараб жо – чорххое мархIам. 281. РекIел бер балагьичIони, бералда канлъи бихьулареб. 282. РекIел бечелъиялда боцIцIул бечелъи бащалъуларебила. 283. РекIел гIадлу биххугеги, чорххол гIамал хисугеги. 284. РекIел гIин гIенеккичIони, гIиналда рагIи рагIулареб. 285. РекIел къварилъиялълъ гьакълиде цIцIалел, дагIба-къеццалълъ кьалде ахIулел. 286. РекIел пашманлъи хъамулеб гьури – хIалтIи. 287. РекIел хIуби – чехь, чохьол хIуби – чед. 288. РекIелI бугеб лъалареб, лъороб бугеб бихьулареб. 289. РекIелI бугеб меххалълъ нилI балъголъиялълъул хханзабийила, цабзаздасса борчIани, нилI гьелълъул лагъзалила. 290. РекIелI бугеб хъублъи гьурмадаги бихьулебила. 291. РекIелI цоги ккун, кIалалълъ батIияб бицунге. 292. РекIелI цIунараб цо хIарп лълъикIабила кагътида цIунараб нусго рагIиялдасса. 293. РекIелI чаран бугессе чинаридул тIилги тIассан ккараб ярагъила. 294. РекIелIа рокьи кIалдисса гIус гIадин бахъуларо. 295. РекIелIан бачIараб рагIи гурони, рекIелIе унареб. 296. РекIиндал Аллагь кIочон тарав, рещтIиндал чу кIочон тарав. 297. РекIиндал чу лъалеб, вилълъиндал рекъав лъалев. 298. РекIине лъараб гIадин, рекIараб чол квелълъ кквезеги лъа. 299. РекIинеги лъа, рещтIинеги лъа. 300. РекIинчIого чу лъалареб, чиякълъичIого чи лъаларев. 301. РекIун бихьун, чу босе, лъун бихьун, кьили босе. 302. РелъанагIан гIодизе кколел. 303. Релъедал макьилI щиб бихьулареб, вокьуларев чиясс щиб бицунареб? 304. Релъи букIунебила бачIарабги бачIине гьабурабги. 305. Релъи гIемералълъуб талихI гIемераб. 306. Релълъаразда релълъаралила росс-лълъади данде чIвалел. 307. Релълъаралда релълъарабила ратIлида рукъи балеб. 308. Релълъаралда релълъарабила рохьдолI хIайванги данделъулеб. 309. «Рес бугезул гъáлалълъ», – ан гьагай бикаялълъ месед гъалазда гьоркьоб хьухьун букIарабила. 310. Рес гьечIеб сон - савуд бухIараб дуниял. 311. Рес къотIидал вагъуларев чи вукIунарев, ручнибе тIамидал багъулареб гьой букIунареб. 312. Рес къотIидал хIинкъаравги къвакIулев. 313. Рес мекъаб гъветI камураб рохь букIунареб, гIабдал камураб росу букIунареб. 314. Рес рекъаравгIан чи – къарумав, мискинавгIан чи – саххаватав. 315. Рес щибила Чакарил, мочол хурий ятидал. 316. Ресги бугони, резги бугони, хъарбекIалда горал тIамизе бигьаяб жойила. 317. РетIел инжит гьабуни, ратIликълъиги бихьулеб, чед инжит гьабуни, чадикълъиги бихьулеб. 318. РетIел къадараб букIа абе, къамартIго чIчIа, мискинчи. 319. РетIел бихьун, къабул гьарулел, гIакълу бихьун, тIоритIулел. 320. РетIел бихьун – чи, чу бихьун – бахIарчи. 321. РетIел тIутIурассде гьабиги рортулел, тIагъур хIуларассда тIохIокги велъулев. 322. РетIел ххашав чияссде ххеххго рагIи реххуге, хъабчилI багьадур ватун, рекIекълизе бегьула. 323. РетIел цIидалъго цIуне, намус гьитIинго цIуне. 324. РетIел цIияб лълъикIаб, гьудул басрияв лълъикIав. 325. РетIине гурони къоги бачIинчIо, къойил ретIун хвараб дарайдул гурде! 326. РетIине камугеги, кваназе тIагIунгеги. 327. РетIине лъаларессе читери кьурав Аллагь, Чуризе лъаларессе мандари кьурав Аллагь. 328. Рехханщинаб чIор гIужда щолареб. 329. Реххаралълъуб тIенкел, тIамуралълъуб турут гIадин. 330. Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб бечелъи. Ххунздерил хханассулги гьидалъессулги бечелъи сабаблъун дагIба-къецц кканила. Жив бечедав вугилан ххан, гурила, жив бечедав вугилан гьидалIев чIчIанила. АхIанила хханасс гьидалIев Ххунзахъе, бихьанила гьессда жиндирго бугебщинаб гIарац-меседги гIарац-меседалълъул гьабураб къайиги. Жойидего гьабичIила гьидалIес гьеб бечелъи. Анила ххан ГьидалIе гьидалIессулги бечелъи бихьизе. ЦохIого цо цагъурги ссанкIалги цIураб ролI бугила гьессул, я гIарац гурила, я месед гурила. ГьидалIессул бечелъиялде бер-ракIго щвечIого, нахъ вуссанила ххунздерил хханги. Анила цо сон, анила кIиго сон, бачIанила Ххунзахъ тIалъиялдаго цIакъ хурукъаб сон. Хханасс, месед-гIарацги босун, гьакалги рачун, жиндирго гIадамал ритIанила ГьидалIе, ролI босизе. ГьидалIес, щибго жоги абичIого, хханассул месед-гIарац чури тIолеб росонибе банила, тIаде гьойги биччанила. Гьелълъ, чуриги чIчIикIун, месед-гIарац, цо мискъал камичIого, росол тIиналда ххутIанила. «Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб нужерго месед-гIарац нахъе босе», – ян абунила гьидалIесс. РачIарал гьакал цIун, ролIги битIанила ххунздерил хханассе. Гьанже бичIчIанила хханассда гьидалIесс живго щай бечедавлъун рикIкIуневали. 331. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила Мала Нассрудиницца, вараниялда куркьбал рижун ратичIелълъул. 332. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила хIамицца, чIчIужугIаданлъун бижун батичIелълъул. 333. Рецц бокьуларев ххан вукIунаревила, ххарж бокьуларев нукар вукIунаревила. 334. Рецц бокьуларев чи къанагIатав, ришват босуларев хIаким дагьав. 335. Рецц гьабун гаргадиялълъ бецц гьарула, гIунгутIаби рициналълъ кантIизарула. 336. Реццалълъ бецц гьавизе вукIунгейила. 337. Реццалълъ гуревила чи гьавулев. Иццухъ дандчIванила лъабго чIчIужугIадан. ТIоццеессей лIугьанила хIаталдасса ун жиндирго вас веццизе. “Дир гIадав малълъарабги гьабулев, гьикъарабги бицунев вас росулIго гьечIо. Лълъицца киве витIаниги, инкар гьабичIого, уна, щиб тIад къаниги, тIубазабула”, – ян абунила гьелълъ. КIиабилелълъги байбихьанила жиндирго вас веццизе. “Валагь, дирги вуго цIакъав вас. ЧIахIиязул адабги гьабула гьесс, гIиссиназул хъатирги гьабула. Цо лълъиениги кумек гьабизе щвани, тIокIаб щибниги къваригIунаро дир дарманассе. Щиб гьабизе дун лIугьаниги, ццеве-ццеве кIанцIун, гьабула”, – ян бицанила гьелълъги. Лъабабилей, гьезухъги гIенеккун, юцIцIун чIчIанила. Гьеб кинабго рагIанила цо херассда. Гьессда ракIалде кканила гьей лъабабилей гIаданалълъул лъимерго батиларилан. Батаниги, гьеб батилин кIкIвахIалаб, хIалтIи рихараб, эбел-инссул адаб гьечIеб рижи. Руччабаз гIертIалги хъубиги лълъел цIунила. Цинги, гъажалда гIертIалги ран, кодор хъубиги ккун, годекIан къотIун, унел рукIанила. Гьенив ганчIида гIодов чIчIун вукIарав цо гьитIинав вас дой щибго жо абичIей гIаданалда асскIове векерун анила. “Дихъе кье, баба”, – янги абун, гьелълъухъа хъаба босанила. Реццарулел рукIарал руччабазул добго ганчIида гIодор чIчIун рукIарал лъималин абуни тIадецин рахъинчIила. Гьеб кинабго бихьарав херасс, бетIерги кIибикIун, абунила - “Реццалълъ гIадан гьавуларо, гIамалалълъ гурони”. 338. РечIчIани, къелIе унев, къани, хIоболIе унев. 339. РечIчIулев-речIчIулев вукIа, цояб щвечIони, цогияб щолеб. 340. Рещалъараб меххалълъ моцIцI тIасса бекула, барщараб меххалълъ бетIичIеб пихъ бортула. 341. РещтIине лъаларев рекIинавуге. 342. РещтIине чIеп гуреб, чIчIезе мокъ гуреб, билълъая, бачинин мунго бичизе. 343. Ригь чIухIарав гуревила бечедав, хур чIухIаравила. 344. Ригьда рега, ригьда рахъа, рузил гIамал жибго те. 345. Ригьин гуро бацIилги гьойдулги гIадаб рекъел, гьудуллъи гуро царалги нухлулассулги гIадаб божилъи. 346. Ригьин – реццалълъул, даран – рекIкIалълъул. 347. Ригьин чияргун лълъикIаб, чи нилIерго лълъикIав (ригьин чияргун гьабе, чи нилIерго ккве). 348. Ригьинги ригьги ургъун гьабе. 349. Ригьнадасса воххарав кидаго берталълъ вуго, ригьин-цIа бигъаразе даимаб гIазаб буго. 350. Ригьнисса гьурал унеб, гьоросса гурцIал унеб (ххасел бащалъиялълъул гIаламатал). 351. Риди гьаризе унесс хъаба баххчулеб. 352. Риди дарулъи лъалебани, нахъияссе щвелароанила. 353. Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман. 354. Рии аги, бугIа гIезе, ххасел аги, рагIи гIезе. 355. Рии кьарияб, кьин хIалакъаб. 356. Рии кьижун арассе ихдал мискинлъиялълъ макьу толареб. 357. Рии нахулаб бачIаги, ххасел бечедаб бачIаги. 358. Рии чIчIедал, хур бекьарав, ххасел чIчIедал, ххер бецарав. 359. Риида – тIингъилI, ххасало – чухъилI. 360. Риидал бакънал рачуней йикIарай ххасало кьурдулей йикIа. 361. Риидал бакъуд мугъ бухIичIони, ххасало чIагIдад чехь бухIуларо. 362. Риидал борохь бихьарав ххасало гIарщикьа хIинкъулевила. 363. Риидал гьарурал ганчIал кьеян абулебила ххасало гIачияз. 364. Риидал гьекичIони, ххасало гьунщуларел. 365. Риидал гIадалнах гьаличIони, ххасало хьаг гьалуларо. 366. Риидал гIодобе бегьараб квер чIобого бачIунареб. 367. Риидал гьабичIеб ххасало батулареб. 368. Риидал жиндие гIоло чIваян абулебила чоцца тIукъби, ххасало нужеего гIоло чIвайила. 369. Риидал кьижани, кьиндал гIака холеб. 370. Риидал кьижарай Кьара ГIашура, Кьиндал гIака холеб рагIичIищ дуда? 371. Риидал риди гьекъе, ххасало нах кванай. 372. Риидал тIимугъ босе, ххасало буртина босе. 373. Риидал – Ххалунчакар, ххасало – Гвангвачакар. 374. Риидал херабги босуге, ххасало хIалакъабги босуге. 375. Риидал хур бекье, ххасало кор баке. 376. Риидал хурив хва, ххасало рокъов хва. 377. Риидал хIалтIарав кьиндал кванала. 378. Риидал черхх берцин гьабула узданаб ретIелалълъ, ххасало – ххинаб ретIелалълъ. 379. Риидал чIарадичIони, ххасало гьороб жо букIунареб. 380. Риидала – Ххассбика, ххасало – къватIулбика. 381. Риидалил цого хур, ххасало гIазукь къараб, Ххасалил цого ссугъур, боххиссан ххер баккараб. 382. Рии-риидал – чIор-чIорол, ххаса-ххасало – гуд-гудучI. 383. Рикьи балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе къали чIехьолареб). 384. Рикьул гьарурал ххинкIал ригьда кунев алазан. 385. РикIкIада бугеб гIагарлъиялдасса асскIов вугев мадугьалго лълъикIила. 386. РикIкIада месед бугилан рагIани, асскIоре щвейдал пахь батулеб. 387. РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула, хун рагIилалде, рукъун ратула. 388. РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардасса квараб ссахI лълъикIаб. 389. РикIкIадассан йихьизе лълъикIай чияр яс асскIоре щун йихьизе жо гурей жо ятула. НекIо гIемериссел магIарул росабалI гIадат букIана абурай яс жиндирго абурассда йихьизе чIчIолареб. Тоххлъукье данде чIван, вас кIалъаниги, яс кIалъалароан. Чанги ячунаан бер чIван йихьичIейги. Гьелълъул хIассилалда гьадаб кициялълъ бицунеб жоги гIемер кколаан. РикIкIадассан гурони чияда рихьуларел бечедал чагIазул жанир тун цIунарал цо-цо ясал канлъукъал, рагIукъал ратулаан. 390. РикIкIаде боржараб гIумру къокъаб цIцIум. 391. РитIухълъи ххвалчадассаги рекIараб. 392. РитIухълъи цIунизелъун рухIалдаги бараххщуге. 393. РитIаралщинал рагIаби берцинал рукIунарел, берциналщинал рагIаби гьерессиялги рукIунарел. 394. РитIухълъи гъоркье, тIекълъи тIаде ккараб заманги букIунебила (Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман). 395. РитIухълъиялде нух ххалатаб. 396. РитIухълъиялълъе диван хIажалъуларо. 397. РитIухълъиялълъул нух гIатIидаб. 398. Рихараб ххоххоцца ххер гIемер кваналеб. 399. Рихханжоялълъул жо гIолареб, гургил чед лIугьунареб. 400. «Рихьдае Бичассул чагIилъун хIараз, Сунатабги гьабун, гьоркьоб тола парз». 401. Риццатазе – тIорахь, тIереназе – риди. 402. РицIцIил тIилада тIорччол бер гъурав вугониги, чоххтIо-чIинчIуялдаса къадараб тIагъур букIунареб. 403. Ришват босуларев хIаким дагьав, хIарам гьабуларев даранчи дагьав. 404. Рододасса нах буххарав, хвараб хIамидасса тIукъби рахъарав. 405. Рокъоб бугеб – къватIул лълъим, кватIиб бугеб – гьацIцIул лълъим. 406. Рокъоб гамачI къулчIчIизе кканиги, къватIиб лъазе тогейила. 407. Рокъоб гьой – къватIибги гьой, рокъоб бацI – къватIибги бацI. 408. Рокъоб как баларев Гогол ГIалицца, гамаялде вахун, жамагIат бана. Кицилъун лIугьарал гьал рагIабаз бицунеб буго ххалкъалда гьоркьор рукIарал жидеццаго какцин баларел, жамагIаталълъе динияб ццебехъанлъи гьабулел рукIарал гIадамазул. 409. Рокъоб къадру гьечIессул къватIибги букIунареб. 410. Рокъоб къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб. 411. Рокъоб къир-къир бугони, дуниял къварилъула. 412. Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIасселълъ. 413. Рокъоб ххам бугони, ххалатаб гурде, ххараб жо бугони, чIахIиял ххинкIал. 414. Рокъоб чед бугессда чияр мацIцI лъаларо. 415. Рокъобго къулгIаги тун, къватIисса лълъим баччарай. 416. Рокъобе нух кидаго гIагараб. 417. Рокъов вукIун, хур босулеб, хурив вукIун, рукъ босулареб (хIажатаб ццебе босе, цогидаб ххадуб босе). 418. Рокъов гъалбацI – къватIив гIанкIкI. 419. Рокъов – дегIен, къватIив - цIцIе. 420. Рокъов цIцIогьор хваги, ЦIцIоров дибир хваги. 421. Рокъой йигеб меххалълъ инссул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ. Кициялълъ бицунеб буго, россассе кьурай яс тIад юссун ячIараб меххалълъ, гьелълъул къадру холилан, хъизаналълъе гьей йокьуларилан. 422. Рокъой йигей лълъадул «лълъикIлъи» батила, лълъимцин хъван гьечIо дур шарбалалда. 423. Рокъой лълъади йокьун, къватIий дун йокьун, Къвалакь гьудул йокьун, берал дий къвакун. 424. Рокъой чIчIужу – бакъги моцIцIги. 425. Рокьаразул такъсир – гьитIинаб мунагь, рихаразул ххатIа – кIудияб мунагь. 426. Рокьи басандичIони, хIалтIул хIур бахъунареб. 427. Рокьи бергьараб жо ккола, эбел-эменни рази гьариги инсанассул борч ккола. 428. Рокьи бикъарав цIцIогьор кколаро. 429. Рокьи бищунго ццидалаб цидулги кколебила. 430. Рокьи гьабизеги вас къваригIунев, Ярагъги борчарав, чуги рекIарав. Балай гьабизеги яс къваригIуней, ГIалххул чундузда гъорлI ритIучI гIадинай. 431. Рокьи гьечIеб черхх – чед гьечIеб таргьа. 432. Рокьи гьечIеб рекIелI ццин букIунаро. 433. Рокьи ккани, кочIохъан яхъуна, чехь бухIани, магIихъан яхъуна. 434. Рокьи ккаразе бусен носол балалдаги гIолебила. 435. Рокьи ккаразе нохъоги – кIалгIа. 436. Рокьи ккарай яс кьералълъ бицуна. 437. Рокьи ккечIей гIаданалда, росода нахъа чIчIун, квен гьабизе лъаларебила. 438. Рокьи ккечIого гьабураб ригьин – гьодораб. 439. Рокьи кьерилI букIунеб. 440. Рокьи, кьолбода гьикъун, гьабулареб, кьал, годекIаниб гьурщун, гьабулареб. 441. Рокьи лълъилго кколеб – рокьуе къвал къазе чи къваригIунев. Балай лълъилго бергьунеб – балай хIехьезеги вас къваригIунев. 442. Рокьи хIарамаб гьечIо, цохIоялълъухъ бугони. Гьекъел хIарамаб гьечIо, гьекъезе лъан, гьекъани. 443. Рокьи – цо, рещтIунеб бакI – кIиго. 444. Рокьиялда гьоркьоб кьалги букIунеб, Балаялда гьоркьоб кьогIлъиги кколеб. 445. Рокьое баге, гьанае бай. Кициялълъул магIна буго хIайваналълъе рагIи-ххер, гьелда гьан букIаго, кьара букIаго, бай, рокьоде ккун ххадуб хIайван кьара гьабизе захIмалъулилан абураб. 446. Рокьуе берцинлъи къваригIунареб, макьие къаданижо къваригIунареб. 446. Рокьуе малълъарухъан хIажалъуларевила. 447. Рокьул рачел къазе чи къваригIуна, Балагьи хIехьезе яхI къваригIуна. 448. Рокьул ццебехъан – маххссара, кьалул ццебехъан – квекIен, кьерхадул ццебехъан – гьури. 449. Рокьуцца ракьа биунеб, балаялълъ берзул нур унеб. 450. РолI бекьарас ролI лъилъулеб, муч бекьарасс муч лъилъулеб. 451. РолIуда гъорлI сусур гIадин вукIунгейила. 452. РолIул хурир ганщалги тун, ссанда ругел бачазе гIадлу гьабулел. 453. Роол къо ххасалил анкьида бащалъулебила. 454. Роол рукъ – буртина, рукъалълъул хΙуби – лълъади. 455. Роржунел жалазда гъорлI чIчIегIераб лачен гIадав. 456. Росс вокьуларей чIчIужуялда гирун бачIунеб гьорчоги гьессул гIайибалдалъун бачIунеб бугилан кколебила. 457. Росс гьавулейги – чIчIужу, росс чIвалейги – чIчIужу. 458. Росс гьечIей чIчIужу – къед биххараб рукъ. 459. Росс какулаго, рукъ кварай, гIака какулаго, нах кварай. 460. Росс квешлъани, лълъадуцца чияхъ рокьи гьабула. 461. Росс кIодо гьавулейги – чIчIужу, чIахIилIе реххулейги – чIчIужу. 462. Росс лълъикIай чIчIужу – лълъикIай, руссун лълъикIаб чу – лълъикIаб. 463. Росс реххулеб кIкIалги – лълъади, росс вахунеб щобги – лълъади. 464. Росс рихаралълъ абулебила жинда росс щакдарулилан, цIцIали рихарасс абулебила жив дибирассе вокьуларилан. 465. Росс хер гьавулейги – чIчIужу, бахIар гьавулейги – чIчIужу. ДахIаххенеро гIадин, гьабил рогIороялълъул бетIералда ххенолеб букIанила цо багIаргIеч. ХIалалав гьабигьан, гьелълъул бетIергьанчи цIеххезе, гьабирахъ чIван эххеде анила. Бищун ццебе батараб ахил бетIергьан – хъахIаб мегежалълъул херав чиясс абунила гIеч жиндир гурин, тIадеххун вугев кIудияв ваццассул батизе бегьулилан. ВитIулаго-витIулаго, гьабигьан тIаде кканила чIчIегIераб михъ-мегежалълъул гIолохъанчи – бищун кIудияв ваццассде. ГIечги гьессул ахикьа бортараб батанила. Гьабигьанасс цIакъ тамаша гьабулеб букIанила ваццазул гIумруялда. КигIан викIараниги, кодобе щвараб жоги букIинчIила. КIудияв ваццасс гьабигьан гьоболлъи гьабизе рокъове вачанила. ЧIчIужуялдаги абунила жидее цо лълъикIаб хъарпуз босун ячIайилан. БачIанила хъарпуз, россассни гьей, дагьабги лълъикIаб босун ячIа, дагьабги лълъикIаб босун ячIаян, лъабцIцIулго нахъюссинаюнила. Цинги, гьаб лълъикIаб бугилан ункъабилеб хъарпузги къотIун, гьабигьанассда гьадин бицанила. Хъарпуз жидер рокъоб цо гурони букIинчIила. ЧанцIцIул нахъ юссинаюниги, чIчIужуялълъ жиндир рагIи хвезабичIила. Гьединай чIчIужу йикIиналълъ жив херлъичIила. Руччабазул ссанагIат гьечIолъиялълъ, ххассго бищун гьитIинав ваццассул лълъадул квешлъиялълъ, жиндир гьитIинал ваццал гьагъадин херлъанила. 466. Россал ругез рокъоб бицунеб, къоролзабаз корохъ бицунеб. 467. Россасс гIатIада хIуччал хъвай – чIчIужуялълъул гIайиб, якьадалълъ царгъида кIулал рай – нусалълъул гIайиб. 468. Россасс лълъади хьихье, лълъецца гьобо ххене. 469. Россасс цIияй чIчIужу ячараб сордоялълъ, хварай чIчIужуялълъул бетIер горбодасса батIалъулебила. 470. Россассда лълъади лъабго къоялълъ юхIулейила, лълъадуда росс лъабго моцIцIалълъ вухIулевила. 471. Россассда рекъарабила лълъадул кIаз букIунеб. 472. Россассда ццим бахъани, чIчIужуялълъ лъимал руххулел, россассул ццим бахъани, чIчIужу юххулей. 473. Россассе индал – хIанкIич, хIорго йикIиндал – мокъокъ. 474. Россассе инегIан – эбел-инссул рукъ, тIад юссун ячIиндал – тушманасул рукъ. 475. Россассе инчIей яс ятагийин, чIчIужу ячинчIев вас ватагийилан гьарулебила гьардухъанасс. 476. Россассе инчIого, гIабдал лъаларей. 477. Россассе кьезе дир яс гIураб меххалълъищин хъалин кьолеб гIадат хвезабулебан абурабила гIандисселълъ. 478. Россассе уней ясалда эбелалълъ малълъарабила - «Дозул доба хъахIалда чIчIегIерабилан абулеб батани, дуццаги гьедин абе, дир яс, чIчIегIералда хъахIабилан абулеб батани, гьединги абе». 479. Россассеги ина, васги гьавила, вацц кисса вахъилев? 480. Россассул къадру-къимат лълъадудассан букIунеб. 481. Россассул рекIелI бугеб жо чIчIужуялълъул кIалдиб букIунеб. Цо ххан вукIаравила кидаго къватIиве вахъунарев «рокъов къурущ». Гьесс къоял инарулел рукIаралила, хъутIахIелеко гIадин, цоялгун вагъун, цоялгун семун, руччабазда гъорлI. Гьессие улка-ракьалълъул ургъелги букIинчIила. Улкаялълъул балъголъабиги, вазирзабазда лъалалдего, руччабазда лъалел рукIаралила. Мадугьалассул чучлъи бихьарав цоги хханасс гьессда лъазабурабила - «Бокьани, рагъде вахъа, бокьичIони, дие пуланал росаби кье!» – ян. Хханасс гьеб балъголъи бищунго йокьулей чIчIужуялда бицарабила, гьелълъги киналго руччабазда гIинчIарабила. Чара хварав ххан цо къоялълъ къватIиве вахъаравила. Къадал ракьандеги ракIарун, гьал гIиссинлъималаз бицунеб жого щибдаян гIенекканила. Бугила гьез бицунеб, мадугьалихъ вугев хханасс нилIер хханассда рагъ лъазабун рагIулила. Вагъизе къуватги гьечIого, чара хун нилIер хханги рагIулила. Гьеб меххалълъ кантIаравила ххан жиндирго гъалатIаздеги ххалкъияб кици битIараб букIиналдеги. 482. Россассулал – лълъадаре, лълъадулал – кIалалълъе. 483. Россги вугей къоролай. 484. Россги вукIуна, росдал гьабзацца квадги вукIуна, чIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна. 485. Россги ГIумаххан вугелълъул, мунгоги Бахху-бикайиланищ ккараб? 486. Росдае гIоло бицараб рагIи – росдае гIоло гьабураб хъулухъ. 487. Росдае ххиянат гьабурав росдал цIецца вухIаги. 488. Росдал анцIилI, бол нусилI. 489. Росдал газа кьурдаги рекIунеб. 490. Росдал гIадат хвеялдасса гIадатаб росу хвей лълъикIаб. 491. Росдал ххабар гIабдалассда гьикъе, рукъалълъул ххабар лъималазда гьикъе. 492. Росдацца хIукму кьуни, хIарпиеги бутIа кьезе кколеб. 493. Росс-лълъади мугъалисса руссараб рукъ – руссунареб сибиралълъул гвенд. 494. Росс-лълъади цолъичIони, рукъ беххе балагьула, рокъоб къир-къир цIцIикIкIани, дунялго къварилъула. 495. Росс-лълъади цоцазда лълъикI лъала, цоял унтараб меххалълъ. 496. Росс-лълъадиялда гьоркьове лIугьарав - гIабдал, гьорода бадиве кIурщарав – ахIмакъ. 497. Росс-лълъадиялълъул гьоркьоблъи лъала, росс жиндирго гурдеялда рукъи базе лIугьараб меххалълъ. 498. Росс-рукъ авадан гьаби лълъадул гьунар-цIцIар буго. 499. Россол рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 500. Росу балагьун, къватIив чIвагеги, къватI балагьун, басралъугеги. 501. Росу бахъун, кьурарай, кьибил бахъун, дургъарай. 502. Росу батIиялълъухъ рокьи ккогеги, Кьибил батIияйгун къадар хъвагеги. 503. Росу бихьун, си борххатаб бай. 504. Росу кIодо, ясал гIемер. 505. Росу лIугьун, къачIарав, кьибил лIугьун, вессарав. 506. Росу рикIкIун – гIадат, гIадан рикIкIун – ххассият. 507. Росу тани, росдаццаги толев. 508. Росу тун арав хвезе росулIе вачIунев. 509. Росу – цо рахъалда, Гьимат – цо рахъалда. 510. Росуго рекъараб кьал букIунареб, кьибилго рекъараб ригьин букIунареб. 511. Росугун дагIбадани, чиякълъула, чIчIужугун дагIбадани, кваникълъула. 512. РосулI гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве. 513. РосулIе унти я базарганассул гьирицца бачIунеб, я гьардохъанассул къвачIицца бачIунеб. 514. РосулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. 515. Роххел гIемералълъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералълъур магIихъаби рахъунел. 516. Рохол багьа къого гъурущ. Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби абун руго базаралда рахи бичулев вукIарав цо магIаруласс. Цо рохохъ къого гъурущ аби гIад гьабун буго рахи босулесс. 517. Рохоцца гIабдалги, гIакъилги, квешалги, лълъикIалги гIадамал жанире рачуна. Гьелдеги учуз буго гьаб, – ан жаваб кьун буго рахи бичулесс. 518. Рохъдол чед гьабурай, чияр чи веэдарай. 519. Рохьалълъ тала босичIого толаро. 520. РохьдолI букIунареб чIухIухъаналде ЧIалгIараб салам дир махил тIилалълъул! 521. РохьдолI тIохIок камулареб. 522. РохьдолI чIчIа, рохьдолI хва. 523. РохьдолI чIчIолареб хIайваналда тIил щола. 524. Рохьил хIайван рохьоб гурони чIчIоларо. 525. Рохьоб гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила. 526. Рохьоб хьараб хьодул пайда щибила. 527. Рохьоб цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ. 528. Рохьоб циги ххутIугеги, цого тIинчIалда божун. 529. Рохьоб чан камулареб, чорххолI унти камулареб. 530. Рохьобго гьечIеб талма, талмикьго гьечIеб гIанкIкI. 531. Рохьобе гIащтIийила, гIалххуде таргьайила. 532. Рохьобе кватIи гурони, гьаб пишаялълъул пайда гьечIилан абурабила гъадицца. 533. Рохьобе тΙил босуге, ралъдалIе лълъимги тIоге. 534. Рохьобе тIил босуге, тIилицца хур бекьуге. 535. Рохьовги вукIун, чIахIида цIа бакарав. 536. Рохьор гъутIбиги ращадал рукIунарелила. 537. Рохьосса вуссунаго, лъабоххида вачIа, дадал. 538. Роццалда рекъарабила рукъи букIунеб. 539. РоццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларебила. ВукIаравила кIиго гьудул. ЙикIарайила гьев кIияссего йокьулей цо ясги. Ясалълъги тIасса вищаравила жиндирго ракIалълъ восарав. Гьарунила гьезие лъималги, букIанила лълъикIабго магIишатги. Гьаб дунялалда лIугьунаребги кколаребги жо щибилахха букIунареб, ракIалдаго гьечIого, сапаралълъ цадахъ кканила дов кIиявго гьудул. Бихьуда росу-ракь гьечIеб цо авлахъалдассан унел рукIанила гьел. Дов ясалълъ тIасса вищичIесс, бахъун чвантинисса таманчагун, гьавцояссда абунила жинцца гьаб бакIалда мун чIвалилан. Цин гьудулассда кканила гьаб маххссара батилилан. Ххадуб, гьессда ракIалда бугеб жо маххссара гуреблъиги щай живго чIвазехъин вугевалиги бичIчIидал, гьасс абунила - - Дир хъизаналълъ доб меххалълъ, дун тIасса вищичIого, мун вищун вукIаравани, дида гьеб хIалихьатаб жо ракIалде ккелароан. Гьеб такъсир гьабуни, дирги дир хъизан-лъималазул гуребги, дуцца чIвазе буго дурго гIумруги… - Дирго гIумру дицца кин чIвалеб? Вихьулеб-рагIулеб бакIалда, инсанали щай гурин, хIайвангицин гьечIо. Лълъида лъалеб мун лълъицца чIваравали? Дицца мун цо хъитIнивеги реххила, тIаде ракьги хъвала – абадиялълъ мун вугеб бакIги лълъиданиги лъаларо! - РоццгьечIалълъ бищунги, гьаб дунялалда щибго балъго ххутIуларилан абула. Бачунге дуцца дудего тIаде гьеб балагь… Гьалмагъассул гьел рагIабазда тIадги велъун, хIалихьатицца гьессда таманча речIчIанила. Анила гьелдасса нахъе чанго сонги, ячанила дов хъурумсахъицца чIварассул йикIарай лълъадилъунги. Цо къоялълъ рагъида гIодов чIчIун россги вукIанила, гIисси-бикъинаб хIалтIуде юссун лълъадиги йикIанила. Дагьа-макъаб гьури бугеб къо букIанила гьеб. Киссан бачIарабали лъачIого, гьороцца босун бачIун, гьезул рагъида рещтIанила роццгьечI. Гьелълъухъги валагьун, росс велъанхъанила. Ссундайин мун велъарав, щибин дуда бихьарабан гьикъанила чIчIужуялълъ. Щибниги бихьичIин, ссунданиги велъичIилан чIчIанила росс. Валлагьин, жого бихьичIого, чи велъуларин, мун жинда велъанилан чIчIанила чIчIужу. Асс абунила, алълъ къотIанила, алълъ абунила, асс къотIанила, аххирги гьаб къецц квешаб рахъалде ссверанила. ЧIчIужу чIчIанила, гьабсагIат ссунда мун велъаравали бицинчIони, жий ячIарабго нухалълъ инссул рокъое инилан. Дуе квешезе бицинилан, гьассги жинццаго гьелълъул росс чIваялълъулги, гьелда ццебе ккараб ххабаралълъулги, “роццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларилан” гьесс абидал, живго велъиялълъулги бицанила. Гьалейин, гьаб роццгьечI бихьидал, кинабгоги ракIалде щун, велъанилан абунила. ЧIчIужу, гьабулеб хIалтIиги жибго тун, рокъожание анила. Гьенибго лъалинисса хханжарги бахъун, гIодов чIчIарав россассда асскIое ячIанила. Гьелейинхха, битIараб букIун бугин жиндир россасс абураб жойилан, хъубухъун босун къазабунила гьессул чохьолI хханжар. Цинги, жинццаго гьабураб жо бицине, росдал бегавулассухъеги ячIарайила. 540. Роцц унтичIого, хоно букIунареб (роцц унтичIого, гIанкIуялълъ хоноги гьабулареб). 541. Роццадасса цIцIикIкIун, чуги кIанцIуларо. 542. Роцен гьечIеб гIемераб квеналдасса цо роццада кунеб дагьаб квен лълъикIаб. 543. Роцен гьечIеб тIехх хханассул тепсиялдаги букIунареб. 544. РоцIцIагиян цIцIани, цIцIад багиян буртIал. 545. РоцIцIараб зодиссан цIцIер балев Аллагь. 546. РоцIцIараб къоялълъ цIцIаназде цIцIаладерил ясалги унел. 547. Роччухъе дунялги букIунаребила, вачIухъе гьоболги вукIунаревила. 548. Ругезда гьечIеланищан, гьечIезда ругеланищан ккарал жалила лъимал. 549. Ругел-гьечIел лъаларел щайтIабакьа щайила хIинкъулел, гьал къойил рихьулел щайтIаби-гIадамакьа щайила хIинкъуларел. 550. РугънатIе цIцIам щвалареб. 551. Ругъун лъечIого, би бецIцIулареб, цIцIад бачIого, тIох гIекколареб. 552. Ругъун сахлъаниги, гIуж кибего унареб. 553. Ругьунаб гуреб роццалда тIажу рекъоларебила. 554. Ругьунаб оцалълъ гIадин хур бекьуларо. 555. Рузида къад канлъи бихьунгутIи бакъул гIайиб гуреб. 556. Рузман чIирчIидулеб, шамат бадарулеб. 557. Рузманкъо битIани, киналго къоял ритIулел. 558. Рукъ бакъараб ссадакъа гьабуге. 559. Рукъ бакъараб ссадакъа – чехь бакъараб къадеквен. 560. Рукъ бала гIадамал цIунизе, ярагъ бала гIадамал гъуризе. 561. Рукъ берцинлъула къачIаялълъ, чи берцинлъула гIелмуялълъ. 562. Рукъ бечелъаги, чи гIемерлъаги. 563. Рукъ бикъидал, къоно тIамурав (Рукъ бикъун ххадуб гуребила къоно тIамулеб). 564. Рукъ босилалде, мадугьал цIеххе. 565. Рукъ гьабулареб жоялълъ къватI гьабулареб. 566. Рукъ гьечIелълъуб хъошги рукъила. 567. Рукъ гьечIессда чи лъала, чед гьечIессда мацIцI лъала. 568. Рукъ гьитIинаб букIин гьоболассдайила лъалеб. 569. Рукъ къваридав чи – лълъади квешав чи. 570. Рукъ лълъухьараб меххалълъ, хIур бахъунеб гIадат. 571. Рукъ рукъалълъ тIубаги, къайи къайиялълъ цIунаги. 572. Рукъалда асскIоб цIцIорораб иццги тун, хьуцIцIил лълъеда ххадув довегIан унарев. 573. Рукъалда лъалареб къватIалда лъан батулеб, нилIедаго бихьичIеб чияда бихьун батулеб (НилIер – чияда, чияр – нилIеда). 574. Рукъалда нах бахунареб даранги гьабуге, гьойдул балъ гьабулев чи гIадин, гIададаги хIалтIуге. 575. Рукъалда нуцIцIа гьечIев, ахикье гъалду гьечIев. 576. Рукъалда нуцIцIа лъолеб рагьизеги къазеги. 577. Рукъалдасса ххирияб бакІ гьечIеб, лъимадасса ххирияб жо гьечIеб. 578. Рукъалълъ басра гьавурав къватIалълъ ццеве кколарев. 579. Рукъалълъ бетIергьанчи гурев берцин гьавулев, бетIергьанчиясс рукъин гьабулеб. 580. Рукъалълъе кинаб бугониги пайда гьабичIеб къо – гIадада араб къо. 581. Рукъалълъул асслу – кьучIчI, хъизамалълъул асслу – чIчIужу. 582. Рукъалълъул бетIергьанасс гьумер битІичIони, гьобол тIокIав вачIунарев, тIилил бухIи гIезабуни, кето баккарулареб. 583. Рукъалълъул бетIергьанассде мутIигIлъулареб рокъоб гIадлу букIунареб. 584. Рукъалълъул гьечIолъи царгъицца баххчула, черххалълъул гьечIолъи тIингъицца баххчула. 585. Рукъалълъул иххтияр бетIергьанчияссухъ тейила. 586. Рукъалълъул къварилъи къадазда лъала, Дир рекIел къварилъи дидаго лъала. 587. Рукъалълъул къварилъи къватIиб лъагеги, къватIул ххабар рокъоб лъагеги. 588. Рукъалълъул кIалтIа хIелекоги багъулеб, кавудал кIалтIа лъималги рагъулел. 589. Рукъалълъул кIудияв меххтичIони, бертин бетулареб. 590. Рукъалълъул хIал лъималазда лъала, къватIалълъул хIал гIабдалассда лъала. 591. Рукъалълъул ургъел къадаздаги лъалеб. 592. Рукъи бай, каратI кIодолъилалде, дару гьабе, унти ххалалъилалде. 593. Рукъи бараб бугониги, ретIелги гIолеб, хъош гIадаб бугониги, рукъги бегьулеб, мамá гьечIого, чи тIуваларев. 594. Рукъи бараб ретIел ретIунаревги чи гуревила, рукъиялда тIад рукъи баравги чи гуревила. 595. Рукъзал кунарел, кули ретIунареб. 596. Рукъилан абураб бакIалде рукъгIанассеб гьецIцIо босулеб. 597. РукIкIадул рорлIигIанассеб картIиниссан оцол бетIергIанассеб квач бачIунебила. 598. РукIкIен аралълъубейила кунги унеб 599. РукIниб букIун гъулгъудун, гъалбацIалълъ чан чIваларо. 600. Румазул гулгун гIадин, габур цIцIабуцIцIунги вукIунге, эбел-эмен хварав гIадин, гIодовеги къулуге. 601. Руссун херлъичIони, чу херлъуларо. 602. Рухьен тIун, тIил бекун, виччарав. 603. РухI бащад буго, рукь бащад цIцIай! 604. РухI бихьунила хIанчIидасса би баккулеб. 605. РухI речIчIилалде тушман чIваларев рухI речIчIараб меххалълъ тушманасс чIвалев. 606. РухIалда рекъонила биги тIинкIулеб. 607. РухIалицца гIадин чи херлъуларо, мискинлъиялълъ гIадин чи къулуларо. 608. РухIел кIочон тезабулеб ракъиялълъ, квен кIочон тезабулеб ццидацца. 609. Ручун кIудияб – жаниб рак гьечIеб, тIину кIудияб – жаниб мугь гьечIеб. 610. Руччабазда балъгояб жо жундуз бицунебила. 611. Руччабазул базаралълъ рукъ ццебе тIоларо. 612. Руччаби кIодо гьарулел лълъикIав чиясс, ятим инжит гьавулев хIалихьатав чиясс. 613. Рущада гьабураб мусрада гурони толареб. 614. Рущи щваралълъубе гIанкIу бачIунеб, жалго реэдаралълъуре лъимал рачIунел. 615. Рущи щваралълъубе гIанкIу буссуна, каву кIудиялълъуве гьардохъан ссверула.
- Кьукьулазул ххизан | МАГIАРУХЪ
Анкьабилеб бутIа. Кьукьулазул ххизан. Анкьабилеб бутIа. Кьукьулазул ххизан. anp'abileb buTa. pupula#ul {i#an. Кьукьулазул Нуцалалълъул вацц вуго. Гьессда Кьукьулазул Цидулав цIцIар буго. Гьев Варангазул Нуцалассулги Кьукьулазул Нуцалалълъулги гьималазул ацци вуго. Кьукьулазул Цидулассул чIчIужу Кьихьилазул КвацIулай йиго. Кьукьулазул Цидулассулги, Кьихьилазул КвацIулалълъулги цо васги, цо ясги руго. Васассда Хъукьав цIцIар буго, ясалълъа КIилълъилай цIцIар буго. Хъукьав Пирххарассулги, БацIилассулги, КиштIайилги, Баххулги ваццгIал вуго. Гьез бел,эрбахъи бунеб буго Анжиб шагьаралълъа гъуниб бугеб Баркатгьенуб росолълъ. Пирххарав, дур аццида цIцIар щиби? Дир аццида Цидулав цIцIар буго. Цидулав дур ваццассулги яццазулги аццищи ккенев? Э, гьев дир ваццассулги яццазулги ацци вуго. КвацIулай щийи ккеней? КвацIулай Цидулассул чIчIужу йиго. Дур эбелалълъул вацц вугищи? Э, дир эбелалълъул цо вацц вуго. Гьессул чами гьимал ругел? Гьессул цо васги, цо ясги руго. Васассда Хъукьав цIцIар буго, ясалълъа КIилълъилай цIцIар буго. Хъукьав нежер ваццгIал вуго, КIилълъилай нежер яццгIал йиго. Пирххарав, дур ацциццаги гьессул чIчIужуялълъги щиб бакIалълъа бел,эрбахъи бунеб бугеб? Гьез Анжиб шагьаралълъа гъуниб бугеб Баркатгьенуб росолълъ бел,эрбахъи бунеб буго. Пирххарав, ножеццагищи росолълъ бел,эрбахъи бунеб бугеб? Гуро, нежецца росолълъ бел,эрбахъи бунеб гьечIо. Ножецца щиб бакIалълъа бел,эрбахъи бунеб бугеб? Нежецца Анжиб бел,эрбахъи бунеб буго. Нуж щиб мацIцIалълъа кIалгьанел ругел? Ниж маарул мацIцIалълъа кIалгьаня. Дур вацц щиб мацIцIалълъа кIалгьанев вугев? Дир вацц маарул мацIцIалълъа кIалгьанев вуго. Ножер энссода чами мацIцI гьанеб бугеб? Гьессда маарул мацIцI гьаня, дагьа-макъаб гIараб мацIцIги гьаня. Пирххарав, дур эбелалълъул кIигощи вацц вугев? Гуро, дир эбелалълъул цо вацц вуго. Дур энссолгищи цо вацц вугев? Гуро, дир энссол вацц гьечIо, яцц йиго. Пирххарав, дур чами яцц йигей? Дир кIиго яцц йиго. Пирххарав, дур чами яццгIал йигей? Дир цо яццгIал йиго. Дур ваццгIалассе чами сон бугеб? Дир ваццгIалассул анцIила ункъго сон буго. Дур аццил чами гьимал ругел? Дир аццил кIиго гьимал руго. КиштIай, мун дурго ваццгIалассдасса кIудайщи йигей? Э, дун дир ваццгIалассдасса кIудай йиго. КиштIай, дур чами сон бугеб? Дир анцIила щуго сон буго Хъукьассе чами сон бугеб? Хъукьассе анцIила кIиго сон буго. Дурги дур ваццгIалассулги яццгIалалълъулги цого кьолбоцIцIарщи бугеб? Гуро, гьезул Кьукьулазул кьолбоцIцIар буго, дир Варангазул кьолбоцIцIар буго. Бахху, мун маарулай гурщи йигей? Э, дун маарулай йиго. Дур ваццгIалги яццгIалги маарулал гурщи ругел? Э, гьел маарулал руго. КиштIай, дур чами вацц вугев? Дир кIиго вацц вуго, Пирххаравги БацIилавги. Ножер ххизамалълъа чами гьимал ругел? Нежер ххизамалълъа ункъго гьимал руго. pupula#ul nucala:ul waC wugo. heSda pupula#ul cidulaw ~ar bugo. hew waranga#ul nucalaSulgi pupula#ul nucala:ulgi himala#ul aCi wugo. pupula#ul cidulaSul Zu$u pi%ila#ul kwa`ulay yigo pupula#ul cidulaSulgi, pi%ila#ul kwa`ula:ulgi co wasgi, co yasgi rugo. wasaSda ]upaw ~ar bugo, yasa:a ji:ilay ~ar bugo ]upaw _ir{araSulgi, ba`ilaSulgi, ki^Tayilgi, ba{ulgi waCfal wugo. he# bel'erba]i buneb bugo an$ib ^ahara:a vunib bugeb barkathenub roso:. _ir{araw, dur aCida ~ar &ibi? dir aCida cidulaw ~ar bugo. cidulaw dur waCaSulgi yaCa#ulgi aCi&i Kenew? e, hew dir waCaSulgi yaCa#ulgi aCi wugo. kwa`ulay &iyi Keney? kwa`ulay cidulaSul Zu$u yigo. dur ebela:ul waC wugi&i? e, dir ebela:ul co waC wugo. heSul xami himal rugel? heSul co wasgi, co yasgi rugo. wasaSda ]upaw ~ar bugo, yasa:a ji:ilay ~ar bugo. ]upaw ne$er waCfal wugo, ji:ilay ne$er yaCfal yigo. _ir{araw, dur aCiCagi heSul Zu$uya:gi &ib baja:a bel'erba]i buneb bugeb? he# an$ib ^ahara:a vunib bugeb barkathenub roso: bel'erba]i buneb bugo. _ir{araw, no$eCagi&i roso: bel'erba]i buneb bugeb? guro, ne$eCa roso: bel'erba]i buneb hezo. no$eCa &ib baja:a bel'erba]i buneb bugeb? ne$eCa an$ib bel'erba]i buneb bugo. nu$ &ib ma~a:a jalhanel rugel? ni$ maarul ma~a:a jalhaNa. dur waC &ib ma~a:a jalhanew wugew? dir waC maarul ma~a:a jalhanew wugo. no$er enSoda xami ma~ haneb bugeb? heSda maarul ma~ haNa, daha-maqab farab ma~gi haNa. _ir{araw, dur ebela:ul jigo&i waC wugew? guro, dir ebela:ul co waC wugo. dur enSolgi&i co waC wugew? guro, dir enSol waC hezo, yaC yigo. _ir{araw, dur xami yaC yigey? dir jigo yaC yigo. _ir{araw, dur xami yaCfal yigey? dir co yaCfal yigo. dur waCfalaSe xami son bugeb? dir waCfalaSul an`ila unqgo son bugo. dur aCil xami himal rugel? dir aCil jigo himal rugo. ki^Tay, mun durgo waCfalaSdaSa juday&i yigey? e, dun dir waCfalaSdaSa juday yigo. ki^Tay, dur xami son bugeb? dir an`ila &ugo son bugo. ]upaSe xami son bugeb? ]upaSe an`ila jigo son bugo. durgi dur waCfalaSulgi yaCfala:ulgi cogo polbo~ar&i bugeb? guro, he#ul pupula#ul polbo~ar bugo, dir waranga#ul polbo~ar bugo. ba{u, mun maarulay gur&i yigey? e, dun maarulay yigo. dur waCfalgi yaCfalgi maarulal gur&i rugel? e, hel maarulal rugo. ki^Tay, dur xami waC wugew? dir jigo waC wugo, _ir{arawgi ba`ilawgi. no$er {i#ama:a xami himal rugel? ne$er {i#ama:a unqgo himal rugo.
- s | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
С s 1. Сабаб тIагIараб жо – гIажал, гIадан холеб жо – ххиял. 2. Саву кьарияб, кьаву хIалакъаб. 3. Саву кьун, кьаву босуге. 4. СагърикьотIа гьабураб ГьимагIурухъ батулеб. 5. СагIат гьечIеб рукъ – гIака гьечIеб бокь. 6. СагIат гьечIев беццав, рузнама гьечIев рекъав. 7. СагIаталълъул гIадлу соналълъул гIибадаталдасса лълъикIаб. 8. СагIатгIан ххалатабги букIунебила къо, лъагIелгIан ххалатабги букIунебила. 9. Сайигъат бачIарав – таххида, бачIинчIев – туртида. 10. Сайигъаталълъе кьоло-гъолон чу щварасс цадахъ ярагъги щай гьечIебилан абурабила. 11. «Салам гIалайкумалълъ» гIи гъурараб, апарагасс росу хвараб. 12. Саламалда рекъарабила жавабги букIунеб. 13. Сапаралдасса, гамачI босунги, чIорого рачIунгейила. 14. Сапаралде вахъунесс хъабарча рокъоб тоге. 15. Сапарцадахъ лъазе бокьани, гьессул хьитинибе чIимихх реххейила. 16. Сапнацца чурунилан чIчIегIерцIцIвак хъахIлъиларо. 17. Сариси гуреб букIун бугеб, тIатIи букIун буго (ХIамида оххцер квине щибила лъалеб). 18. Сардил ххалалъи лъалеб унтарассда, къойил ххалалъи лъалеб вакъарассда. 19. Сасу бекуларо, кун тIечIелдасса. 20. Сасу кьун, рукIкIен кьунила рокьи гьабулеб. 21. Сахаб гьой гважуда тIад речIчIулареб. 22. Сахав бахIарчияссе нусго гьунарги дагьаб. 23. Саххаватасс мусру чиядаги балебила, къарумасс жиндаго барабги кIкIунебила. 24. Сахлъи бокьани, бетIер гьогьмада, хIатIал ххинлъуда, чехь бакъун хьихьейила. Кибего цIцIар рагIарав тоххтир вукIаравила. ГIадамаз гьессда абулеб букIарабила, Аллагьассул къадаралде щоларев чиги вукIанарин, дуцца дурго устарлъиялълъул балъголъи, цадахъ босичIого, ххадур рачIунезе цIунун щайин толареб. Гьессги абулеб букIарабила, жинцца гьеб цадахъ босиларин, жив хун ххадуб, жиндир гъанссинире раккейин, гьениб батилин нужеда жиндир гьунаралълъул балъголъи хъвараб тIехь. Хванила тоххтир. Ракканила гьессул гъанссинире. Батанила гьениб цIакъ щулаго бухьа-къараб жо. Цо бечедав чиясс, ирсилаз абураб багьаги кьун, босарабила гьеб. Бихха-бичараб меххалълъ гьениб батарабила тIехь. Гьелълъул тIоццебессеб гьумералда ратаралила кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби, цогидал гьурмазда щибго хъван батичIебила. 25. Сахлъи букIаго, хIалтIи гьабе, черхх букIаго, ретIел ретIе. 26. Сахлъи гьечIеб унтудассаги нагагьаб балагьалдассаги цIунаги. 27. Сахлъи гьечIев хханассдасса сахлъи бугев лагъго талихIавила. 28. Сахлъи гьечIессе бечелъи щай? 29. Сахлъиги кьун, унти босарав. 30. Сег кванараб чода канлъи бихьулареб, бечелъараб меххалълъ чияссда чияр гIакълу берцин бихьулареб. 31. СихIираб гьимиялдасаги цIунаги, гьуинаб реццалдассаги цIунаги. 32. СихIирав гIабдал. 33. СихIирав чияссулгун даранги гьабуге, гIантав чияссулгун оцги баге. 34. Сордо базаеян гъотIода рещтIараб гъеду гIумруялълъго гьениб ххутIун рагIула. 35. Сордо бачIунареб къо букIунареб. 36. Сордо бецIцIаб бугогIан, цIцIваби гвангъун рукIуна. 37. Сордо къватIиб – ххинкI рокъоб. 38. Сордо сардие те. 39. Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна. 40. Сордо-къо цIцIикIкIарассул гIакълу цIцIикIкIараб. 41. Суалалда рекъон, къокъ гьабун, кье жаваб. 42. Сумал чIалу гьабуге, гьалил михир гьабуге. 43. Сумалда сум лъуни, гул лIугьунеб. 44. Сусур цIцIикIкIаралълъуб бугIа дагьаб, рагIи гIемералълъуб гIакълу дагьаб. 45. Сусур чIаралаго, ролIул чIорал гьоркьоре ккунги ратулел, гIакайилан ккун, хIама бечIчIулелги ратулел.
- q | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Й y 1. «Юргъа бачани, бетIергьанчихвад, мун чияца рекIуна». Мискинав магIарулассул букIун буго лълъикIаб тайичу. Гьеб лIугьун буго юргъа бачине. Кицилъун лIугьарал гьадал рагIабиги абун, мискинчиясс тайичу тамахлъизегIан бухун буго. 2. Юргъаялълъ – чу, ишалълъ – чи. 3. Я гьанив гурев, я дова гурев. 4. Я гIарцул чванта цIела, я салул гвангвара цIела. 5. Я гIурул рагIал, я мугIрул ракьан. Гуржиялълъа вачIарав гьобол вукIаравила. Хханасс гьессда гьикъарабила кив мун чIчIелев, кинаб бакI дуе бокьилебан. Гьесс тIасса рищаралила магIарул ххалкъалда гьоркьор абилъун ххутIарал гьадал бакIал. 6. Я зурзур те, я квен те. 7. Я къали чIвай, я зурма пуй. 8. Якьадалълъ лълъухьизе нусалълъ тун, нусалълъ лълъухьизе якьадалълъ тун. 9. Я хIама хвела, я хан хвела. 10. Я мими гурев, я дуду гурев. 11. Я нилIерго хIал, я хIалае чи. 12. Я ракьа гуреб, я гьан гуреб. 13. Я тIинай кIудияй гIела, я кIудиялълъул росс хвела. 14. Я хваралълъ гурев, я гIуралълъ гурев. 15. Я ццее гурей, я нахъа гурей. 16. Я ццудунав вас лълъикIав, я хъукьав вацц лълъикIав. 17. Я чехь цIцIалтараб квен, я квер цIцIалтараб мухь. 18. Я чи хIинкъулеб черхх, я чиякьа хIинкъулареб ракI. 19. Ябуялда юргъачу белъулеб, юргъачуялда ябучу белъулеб. 20. Ябуялълъ ябу кколеб, бидаялълъ бида кколеб. 21. Ярагъ борчинеги мун нечолелълъул, Дуе тIил къотIизе дун кие иней? Чода рекIинеги мун хIинкъулелълъул, Дуй хIама босизе дун кие иней? 22. Ярагъ борчинеги чи къваригIуна, чода рекIинеги вас къваригIуна. 23. Ярагъ гьечIого, чанаве арав, чан щвечIого, вуссуна. 24. Ярагъ гьечIого, чи вагъуларо. 25. Ярагъ гIумруялълъ борчунеб, цо къоялълъ къваригIунеб. 26. Ярагъ къеда бай, къалам кодоб ккве. 27. Ярагъ лъалиниб цIуне, рагIи гIаданиб цIуне. 28. Ярагъги борчине, чуги рекIинейин вас гьавулев. 29. Яргъил кьвагьиялдасса квартIил кутIи берцинаб. 30. Яргъил рагъ букIунареб, кIиябго рахъалдассан би баккулареб. 31. Яргъицца цояв чIвалевила, мацIцIицца анцIгояв чIвалевила. 32. Яс абизе рачIарал жидерго бечелъиялълъул бицине лIугьиндал, инссуцца абурабила - «Гьеб гIолеб батани, лълъидассаго лълъикI гьай хьихьизе дидаги кIола». 33. Яс абураб соналълъ васгун кIалъаге, яс унеб нухдаги чIчIоге. 34. Яс гьайилалде дурцц гьавуге, гьезул къадар Аллагьассда гурони лъаларо. 35. Яс гьаюраб къоялдасса нахъе къайи босарай эбелалълъул ражихо камун батарабила. 36. Яс гьаюраб къоялълъ чехь бухIулеб, гIураб къоялълъ рукъ бухIулеб. 37. Яс гьечIей эбел, унти чIварабго, холейила. 38. Яс гIейгун, гIеретI бекулеб гIадат. 39. Яс йихьулеб матIу – расайила. Васассе чIчIужу ячине ургъулел рукIун руго. Васасс абун буго мадугьалихъ ругел ясазда гьоркьой бищун лълъикIай пуланай яс йигилан. Эбелалълъ абун буго, дуда ясал лъалел гьечIин, батIияй яс лълъикIай йигилан. Васассда жий йитIарай йикIин бихьизабизе, эбел, унтараб ххвелги гьабун, егун чIчIун йиго. Мадугьалзабазул ясаз, раккизеги рачIун, гьелда щиб бокьилеб, гьечIищ хьул лъураб жогоян гьикъун буго. Эбелалълъ гьезда абун буго, раса хъвагIараб жоялълъул гурга щвани, ссундассаго гьеб бокьилаанилан. Эбелалълъ лълъикIайлъун рикIкIуней яс тамашалъун йиго, гурга гьабизе гIураб гIатI росода киб букIинебан. Васассе йокьарай ясалълъ абун буго жидер росода бугин, чед гьабизе бокьаниги гIурабан. 40. Яс йичуге, нус йосуге. 41. Яс йокьун, дурцц вокьулев, нус рихун, вас рихунев. 42. Яс кьезе кIиго соналълъ ургъейила, вас тIувазе сордо-къоялълъ ургъейила. 43. Яс хьихьулеб жо – эбел, цIа босулеб жо – гъецI. 44. Яс цIцIодорай лIугьаги, вас лумияв лIугьаги. 45. Яс цIунизе вас тоге, гIи цIунизе бацI тоге. 46. Яс юххичIей эбелалълъ накаби руххизе кколел. 47. Яс эбелалда, вас инссуда релълъаралила лIугьунел. 48. Яс эбелалда релълъарай яче, чу гIалаялда релълъараб босе. 49. Ясалдасса лълъикIай нус йикIинеги бегьулей, васассдасса лълъикIав дурцц вукIинеги бегьулев. 50. Ясалълъе рагIи бициналде, дурцц сапаралълъ цадахъ ккезаве. 51. Яхине кьуру гуреб, кьурдизе майдан гуреб. 52. ЯхI бичун, чед босуге, чилъи бичун, багьа босуге. 53. ЯхI бугессе дуниялги хоб. 54. ЯхI бугей лълъади россассдасса бергьинаро. 55. ЯхI гьечIессул цIцIобалде ккогеги, цIцIоб гьечIессул кверщаликье ккогеги. 56. ЯхI цIецца бухIулареб, гIакълу гIоралълъ унареб. 57. ЯхIалълъ къо реххугеги, къуваталълъ некь реххугеги. 58. ЯхIги рухIги – бащадаб жо. 59. ЯхI-намус гьечIев нусго бечедассдасса намус бугев цо мискинчиго лълъикI. 60. Яццалълъул ракI – ваццгун, ваццассул ракI – рохьоб. 61. Ячеян дуда гьардезе ккогеги, ячIаян мун гьардезе ккогеги. 62. ЯчинегIан «эбелхвад», ячун ххадуй «мунгохвад». 63. Ячудасса нусалълъ вакьадассде дадайилан абулебила, дагьаб ххадуб дандамадилан абулебила. 64. Ячун щваралдасса ячIун щварай лълъикIила. 65. Ячунги ячуней лълъади, ячIунги ячуней лълъади. 66. Ячуней мекълъугеги, ячIуней тIекълъугеги. 67. ЯчIунелълъул – «далалай», дун толелълъул – «вабабай».
- r | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
С s 1. Сабаб тIагIараб жо – гIажал, гIадан холеб жо – ххиял. 2. Саву кьарияб, кьаву хIалакъаб. 3. Саву кьун, кьаву босуге. 4. СагърикьотIа гьабураб ГьимагIурухъ батулеб. 5. СагIат гьечIеб рукъ – гIака гьечIеб бокь. 6. СагIат гьечIев беццав, рузнама гьечIев рекъав. 7. СагIаталълъул гIадлу соналълъул гIибадаталдасса лълъикIаб. 8. СагIатгIан ххалатабги букIунебила къо, лъагIелгIан ххалатабги букIунебила. 9. Сайигъат бачIарав – таххида, бачIинчIев – туртида. 10. Сайигъаталълъе кьоло-гъолон чу щварасс цадахъ ярагъги щай гьечIебилан абурабила. 11. «Салам гIалайкумалълъ» гIи гъурараб, апарагасс росу хвараб. 12. Саламалда рекъарабила жавабги букIунеб. 13. Сапаралдасса, гамачI босунги, чIорого рачIунгейила. 14. Сапаралде вахъунесс хъабарча рокъоб тоге. 15. Сапарцадахъ лъазе бокьани, гьессул хьитинибе чIимихх реххейила. 16. Сапнацца чурунилан чIчIегIерцIцIвак хъахIлъиларо. 17. Сариси гуреб букIун бугеб, тIатIи букIун буго (ХIамида оххцер квине щибила лъалеб). 18. Сардил ххалалъи лъалеб унтарассда, къойил ххалалъи лъалеб вакъарассда. 19. Сасу бекуларо, кун тIечIелдасса. 20. Сасу кьун, рукIкIен кьунила рокьи гьабулеб. 21. Сахаб гьой гважуда тIад речIчIулареб. 22. Сахав бахIарчияссе нусго гьунарги дагьаб. 23. Саххаватасс мусру чиядаги балебила, къарумасс жиндаго барабги кIкIунебила. 24. Сахлъи бокьани, бетIер гьогьмада, хIатIал ххинлъуда, чехь бакъун хьихьейила. Кибего цIцIар рагIарав тоххтир вукIаравила. ГIадамаз гьессда абулеб букIарабила, Аллагьассул къадаралде щоларев чиги вукIанарин, дуцца дурго устарлъиялълъул балъголъи, цадахъ босичIого, ххадур рачIунезе цIунун щайин толареб. Гьессги абулеб букIарабила, жинцца гьеб цадахъ босиларин, жив хун ххадуб, жиндир гъанссинире раккейин, гьениб батилин нужеда жиндир гьунаралълъул балъголъи хъвараб тIехь. Хванила тоххтир. Ракканила гьессул гъанссинире. Батанила гьениб цIакъ щулаго бухьа-къараб жо. Цо бечедав чиясс, ирсилаз абураб багьаги кьун, босарабила гьеб. Бихха-бичараб меххалълъ гьениб батарабила тIехь. Гьелълъул тIоццебессеб гьумералда ратаралила кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби, цогидал гьурмазда щибго хъван батичIебила. 25. Сахлъи букIаго, хIалтIи гьабе, черхх букIаго, ретIел ретIе. 26. Сахлъи гьечIеб унтудассаги нагагьаб балагьалдассаги цIунаги. 27. Сахлъи гьечIев хханассдасса сахлъи бугев лагъго талихIавила. 28. Сахлъи гьечIессе бечелъи щай? 29. Сахлъиги кьун, унти босарав. 30. Сег кванараб чода канлъи бихьулареб, бечелъараб меххалълъ чияссда чияр гIакълу берцин бихьулареб. 31. СихIираб гьимиялдасаги цIунаги, гьуинаб реццалдассаги цIунаги. 32. СихIирав гIабдал. 33. СихIирав чияссулгун даранги гьабуге, гIантав чияссулгун оцги баге. 34. Сордо базаеян гъотIода рещтIараб гъеду гIумруялълъго гьениб ххутIун рагIула. 35. Сордо бачIунареб къо букIунареб. 36. Сордо бецIцIаб бугогIан, цIцIваби гвангъун рукIуна. 37. Сордо къватIиб – ххинкI рокъоб. 38. Сордо сардие те. 39. Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна. 40. Сордо-къо цIцIикIкIарассул гIакълу цIцIикIкIараб. 41. Суалалда рекъон, къокъ гьабун, кье жаваб. 42. Сумал чIалу гьабуге, гьалил михир гьабуге. 43. Сумалда сум лъуни, гул лIугьунеб. 44. Сусур цIцIикIкIаралълъуб бугIа дагьаб, рагIи гIемералълъуб гIакълу дагьаб. 45. Сусур чIаралаго, ролIул чIорал гьоркьоре ккунги ратулел, гIакайилан ккун, хIама бечIчIулелги ратулел.
- n | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
С s 1. Сабаб тIагIараб жо – гIажал, гIадан холеб жо – ххиял. 2. Саву кьарияб, кьаву хIалакъаб. 3. Саву кьун, кьаву босуге. 4. СагърикьотIа гьабураб ГьимагIурухъ батулеб. 5. СагIат гьечIеб рукъ – гIака гьечIеб бокь. 6. СагIат гьечIев беццав, рузнама гьечIев рекъав. 7. СагIаталълъул гIадлу соналълъул гIибадаталдасса лълъикIаб. 8. СагIатгIан ххалатабги букIунебила къо, лъагIелгIан ххалатабги букIунебила. 9. Сайигъат бачIарав – таххида, бачIинчIев – туртида. 10. Сайигъаталълъе кьоло-гъолон чу щварасс цадахъ ярагъги щай гьечIебилан абурабила. 11. «Салам гIалайкумалълъ» гIи гъурараб, апарагасс росу хвараб. 12. Саламалда рекъарабила жавабги букIунеб. 13. Сапаралдасса, гамачI босунги, чIорого рачIунгейила. 14. Сапаралде вахъунесс хъабарча рокъоб тоге. 15. Сапарцадахъ лъазе бокьани, гьессул хьитинибе чIимихх реххейила. 16. Сапнацца чурунилан чIчIегIерцIцIвак хъахIлъиларо. 17. Сариси гуреб букIун бугеб, тIатIи букIун буго (ХIамида оххцер квине щибила лъалеб). 18. Сардил ххалалъи лъалеб унтарассда, къойил ххалалъи лъалеб вакъарассда. 19. Сасу бекуларо, кун тIечIелдасса. 20. Сасу кьун, рукIкIен кьунила рокьи гьабулеб. 21. Сахаб гьой гважуда тIад речIчIулареб. 22. Сахав бахIарчияссе нусго гьунарги дагьаб. 23. Саххаватасс мусру чиядаги балебила, къарумасс жиндаго барабги кIкIунебила. 24. Сахлъи бокьани, бетIер гьогьмада, хIатIал ххинлъуда, чехь бакъун хьихьейила. Кибего цIцIар рагIарав тоххтир вукIаравила. ГIадамаз гьессда абулеб букIарабила, Аллагьассул къадаралде щоларев чиги вукIанарин, дуцца дурго устарлъиялълъул балъголъи, цадахъ босичIого, ххадур рачIунезе цIунун щайин толареб. Гьессги абулеб букIарабила, жинцца гьеб цадахъ босиларин, жив хун ххадуб, жиндир гъанссинире раккейин, гьениб батилин нужеда жиндир гьунаралълъул балъголъи хъвараб тIехь. Хванила тоххтир. Ракканила гьессул гъанссинире. Батанила гьениб цIакъ щулаго бухьа-къараб жо. Цо бечедав чиясс, ирсилаз абураб багьаги кьун, босарабила гьеб. Бихха-бичараб меххалълъ гьениб батарабила тIехь. Гьелълъул тIоццебессеб гьумералда ратаралила кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби, цогидал гьурмазда щибго хъван батичIебила. 25. Сахлъи букIаго, хIалтIи гьабе, черхх букIаго, ретIел ретIе. 26. Сахлъи гьечIеб унтудассаги нагагьаб балагьалдассаги цIунаги. 27. Сахлъи гьечIев хханассдасса сахлъи бугев лагъго талихIавила. 28. Сахлъи гьечIессе бечелъи щай? 29. Сахлъиги кьун, унти босарав. 30. Сег кванараб чода канлъи бихьулареб, бечелъараб меххалълъ чияссда чияр гIакълу берцин бихьулареб. 31. СихIираб гьимиялдасаги цIунаги, гьуинаб реццалдассаги цIунаги. 32. СихIирав гIабдал. 33. СихIирав чияссулгун даранги гьабуге, гIантав чияссулгун оцги баге. 34. Сордо базаеян гъотIода рещтIараб гъеду гIумруялълъго гьениб ххутIун рагIула. 35. Сордо бачIунареб къо букIунареб. 36. Сордо бецIцIаб бугогIан, цIцIваби гвангъун рукIуна. 37. Сордо къватIиб – ххинкI рокъоб. 38. Сордо сардие те. 39. Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна. 40. Сордо-къо цIцIикIкIарассул гIакълу цIцIикIкIараб. 41. Суалалда рекъон, къокъ гьабун, кье жаваб. 42. Сумал чIалу гьабуге, гьалил михир гьабуге. 43. Сумалда сум лъуни, гул лIугьунеб. 44. Сусур цIцIикIкIаралълъуб бугIа дагьаб, рагIи гIемералълъуб гIакълу дагьаб. 45. Сусур чIаралаго, ролIул чIорал гьоркьоре ккунги ратулел, гIакайилан ккун, хIама бечIчIулелги ратулел.
- khkh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
М m M «Ма» бокьулев, «кье» рихарав. «Ма ссахI!» – ан бачIунеб гIака, «Кье ссахI!» – ан бачIунеб чу. «Ма» – ялда ццебе хIетIе лъоге. Мавул рокьи букIунеб, кьовул божи букIунеб. Магжида нус бабадулеб рекIинчIеб меххалълъ, кIалдиб мацIцI кIичIардулеб гьересси бицунеб меххалълъ. МагжилI иман букIунареб, рекIелI гурони. Магъал гьанахъ гьоэр щолареб (нилIее къваригIараб къоялълъ лълъикIалълъухъги квешаб щолареб). Магъил гIел тезеги Аллагьассул хIукмуйила. Магъил ургъел гьабулагойила хIанчIчIил боххдул тIеренлъарал. МагъилI ругел хурзабазги хабалI ругел умумузул рукьбузги гьабизе жо гьечIо – хIара хIажат буго. Магъихъ балагьун, кьурде, цер. Магь цIезе ссан гурел, ссахI цIезе хур гурел. Магъихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье. МагIарда бартуццаги лълъикIабаб кколебила. МагIарда гIи бугев – гIаг гьечIеб шарбал, ГIиялI куйдул ругев – тIох гьечIеб тIагъур. МагIарда чан букIаго, чурун хьаг цIеда лъоге. МагIардаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел. МагIарде ваханиги, гьитIинав кIодолъуларевила, гвандиниве рехханиги, кIудияв гьитIинлъуларевила. МагIарде гъуниги, хIамицца заз гурони кунареб. МагIарде гIазу баги, гIухьби рокъой рачIине, ГIурдаде саву ккаги, вокьулессда бер чIвазе. МагIарде гIазу бани, гIурухъе цIцIорой кколеб. МагIарзухъа кIалдибегIан къокъаб жойила гьересси. «МагIарзухъан бачIаги!» - ян, чед кьун, воххизавуге дун; гьумер битIун кIалъараб кIалалълъ воххизаве дун. МагIарул киниялълъ гIадин магIарул чияссул черхх лълъадаруларо. МагIарул мацIцIалда кечI ахIулел, гIурус мацIцIалълъ гаргадулел магIарулал. МагIарулазул хур хвани, хьиндалазул пихъги холеб. МагIарулассул нахъагIакълу. МагIарухъ дибирлъи щоларев – лъарагIалде, лъарагIалда дибирлъи щоларев – Нугъаялде. МагIарухъе вачIани, дурго гьобол лъаларев, Чачаналде вачIани, дурго хIама лъаларев. МагIирокъоб гIоди рекъараб, берталълъ аваданлъи рекъараб. МагIицца квен босарай, кочIоцца рос восарай. МагIицца магIирукъ берцин гьабулеб. МагIу кIиго батIияб букIунебила: цояб чваххун бачIунеб, цояб бачIинабураб. МагIу-рагIиялълъул ххалалъиго щиб, ххарицел гуреб жо мокърукьги гьечIин? Гьуя-гьараялълъул гьарзалъиго щиб, хъандиро гуреб жо магIида гьечIин? НекIо кицилъун тIиритIарал гьал рагIабаз бичIчIизабулеб буго мискинчияссухъ гIоди гIададиссеб бугилан. МагIихъаналда рагIун букIун гьечIо: «БоцIцIи хIажат гьечIо, хIара къваригIун буго», – абураб битIараб кици. МагIу рекъезе – рагIи, кечI рекъезе – далалай. МагIу рекъезе – рагIи , риба хIалаллъизе – хIила. Буссурман диналда риба гьабизе (къарзалълъе гIарац нусел лъун, яги ххайир гIахьал гьабизелъун кьезе) бегьуларо. Гьеб рикIкIунаан хIарамаб жолъун. Гьеб хIарамлъиялдасса жалго рорчIизе, рибачагIаз гьадинаб хIила гьабулаан: Дицца дудасса духъе кьуралдасса тIокIаб кепек тIалаб гьабуле гьечIо, «ракI разилъунни», дуцца дие «чIобого» кье нилIедаго гьоркьоб разилъи ккараб къадар. Данде ккве гIонкIкIол кици: «Диего гIоло абулеб жо батани, дир чехь бихъаги, гьирдани тIад къвачIа рекъараб жо буго». МагIу-рорчIи хханассул гIадаб, хвел букъи Гергил гIадаб. МагIу хвалилI ахIе, кечI берталI ахIе. МагIуги кечIги, рекIеда бухIараб меххалълъ гурони, бачIунаро. Мадинатги Гагуги гIадин. Мадинатги Гагуги рукIаралила цIакъ цоцазе рокьарал кьерилал. Цоцаздасса ратIалъун, Мадинат ккарабила нилIер рахъалде. Гагу ххутIарабила рикIкIадаб улкаялда. Гьеб къоялдасса нахъе нилIер Мадинатги бугебила «Гагу! Гагу!» – ян ахIдолеб ххутIун. Гьеб биценалда данде ккун хъварал руго ЦIадасса ХIамзатил ххадур реххссарал рагIаби: «Дун гурхIулароан, гохI-гохIалда чIчIун, Гагу! – ян ахIдолеб Мадинатида. БукIун буго гъарим, гьанже дун гIадин, Дандеябги билун, балагьалда гъун». Мадугьал квешлъани – рукъ хисе, чIчIужу квешлъани – цIцIар тIаме, чу квешлъани – биче. Мадугьал лълъикIав гьоркьоб къед борххатав; гьудул лълъикIав рукъ рикIкIадав. Мадугьал лълъикIассул ражихо-хоно россассе арабила, мадугьал квешассул лълъикIай яс рокъой ххутIарайила. Мадугьалассда велъуге: бадибчIвай бихьизе гурин. Мадугьалассул гьобол хунилан, Гьолокье магIиде арай. Мадугьалассул хIалтIи малълъунги, ясал чIчIун тогейила. Мадугьалассул хIелеко хъазлъун бихьулебила. Мадугьалассул чед гьуинаб, чияр чIчIужу берцинай. Мадугьалассулгун гьоркьоблъи бокьарасс рагьда гьой хьихьулареб. МадугьалассулI кин вукIараван гьикъулебила къиямассеб къоялълъ Аллагьасс жиндирго лагъассда. Чи хун, гьессул хIисаб-суал гьабулеб меххалълъ, тIоццебе Аллагьасс жиндир лагъассда гьикъулебила мадугьалассулъ кин вукIараван. Динияб рахъги ххал гьабичIого, гIаданлъи-намусалълъул рахъ босаниги, мадугьалассулъ лълъикI вукIин – гьеб буго бахIарчияссулI букIине кколеб бацIцIадаб ххассият. Мадугьалзабазги беццани, цIцIилцIцIиеги росс щолевила (цIцIилицIцIги россассе унебила). Мадугьалихъ йигей палихъаналда щибго лъалареб, лъаларей рикIкIадегIан йигелда «кинабго лъалеб». Мадугьалихъги ватугеги кIкIухIалав чи, хобги асскIобе ккогеги хIалихьатав чияссда. Мазандаран дарай диеги щвечIо, жулпакатаналда дунги рекъечIо. Мазгьаб гьечев чи – чед гьечIеб таргьа. Майданалда баххчун, цер чанахъанасс толаро. Мазлумассе зулмуялълъул къоялдасса залимассе гIадлуялълъул къо захIмалъулеб. Макру-хIила гIемерасс цо тIабигIат кколаро. Макьидасса бергьараб жо гьечIебила. Макьие гурони, вегизе ккогеги. Макьие ссабру гьечIеб, рокьуе берцинлъи гьечIеб. Макьу гьуинал беразда сардил ххалалъи лъалареб. Макьу тарав тушман ххадув ккогеги. Макьу толеб жо – ургъел, гIадан холеб жо – ххиял. Макьу щварал кьижула, рокьи ккарал ссвердула. Мали Къвегъадаго, къвал мажгитухъго. Къвегъада буго ххунздерил хабалазда асскIоб бугеб хварал росулеб мали лъолеб бакI. Кици хIалтIизабула молода лъоларевги къвалицца вухьунаревги чи вукIунарин, чIухIдаруге абураб магIнаялда. Маланассрудинида гьикъарабила жаназадул молол ццебейищин лълъикI букIунеб, нахъайищилан. Ццебе-нахъаялълъул батIалъи гьечIин, тIад лълъикIаб букIунарилан абурабила гьесс. Маланассрудинил далай лIугIаниги, чIандахабаралълъе лIугIи гьечIебила. Маланассрудинидаги илбисалдаги гьоркьоб къотIи ккун букIарабила, цо-цо кечI ахIун бахъинегIан, цоцазул гъежда рекIине. Цин илбисалълъул гъежда рекIарав Маланассрудиницца ахIарабила лIугIиго гьечIеб «далай-далай». «ЛIугIуларищ? ЛIугIуларищ?» – ан зигардулебги букIун, илбисалълъ гьарарабила, жиб дур гъеждаги рекIинарин, кечIги ахIиларин, талихI кьегийин, гъоркье лIугьаян. МалахIосен ахIарав ахIе, ХIункърае кьурассе кье. Малълъ кIутIаниги, ботIрода унтулеб. Малълъаниги лъалареб, бетIер гьодораб бугони; малълъичIониги босулеб, бетIер цIцIодораб бугони. Малълъараб босизе чи тIагIун ххутIугегийила. Малълъараб босуларевги – ахIмакъ, босуларессда малълъаравги – гIабдал. Малълъараб гьабе, гьикъараб бице. Малълъараб гьабичIев ХIавал ГIалицца хIуличIого бана гIака магIида. Малълъараб гьабуни, дагIба кколаро, гьикъараб бицани, кьал букIунаро. Малълъараб гьабуни, мекъсса кколаро. Малълъараб гьудуласс – гьабураб дицца. Малълъарабги гьабичIо, гьикъун бихье жиндаго, гьикъарабги бицинчIо, гьеле живго чи ццеве. Малълъарабги лъаларей, лъарабги гьабуларей. Малълъарассул кIал бекулареб, кIанцIарассул бохх гурони. Малълъарассул малълъарабги гьабунила жиндир эбел хварайилан абурабила Маланассрудиницца. Малълъаризе цIакъав, гьабизе къадарав. Малълъарун чи лIугьунарев, буххун хIамил чу лIугьунареб. Малълъарухъаби гIемерлъани, гIадлу холеб. Малълъизе киназдаго лъалеб, гьабизе цояссда гурони лъалареб. Малълъизе чи камуларо, малълъараб босизе бетIер букIине ккола. «Малълъизе чи тIагIаги дур лъималазе!» - ян абурабила цоялълъ. «Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босугеги дуразго!» – ян абурабила дандеялълъ. Малълъизе чи тIагIагиян гьарарабила цоялълъ; малълъараб босизе чи нужерги тIагIагиян хьамурабила дандеялълъ. Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босаги. МалълъичIеб гьабуге, гьикъичIеб бицунге. МалълъичIеб гьабурав, кьечIеб босарав. МалълъичIониги лъалеб, лъалесс гьабулелълъухъ ралагьани. МалълъичIониги лъалей, лъачIониги гьабулей. Малълъ босе гьитIинго, лъеберилI малълъизе ккарассдасса Аллагьасс цIунаги. Малълъа ццебеялдасса ххадуб. Малълъулел гIемерлъани, гIенеккулел дагьлъула. Малълъун гуребила лъалеб, бихьунила (Малълъун гурелила цIцIодорлъулел, бихьунила). Малълъун гуро чудкицца балкан кунеб, куцан гуро царацца къехь бищулеб. МалълъичIого цIцIаларав, цIцIаличIого дурусав. Малълъун чиги лIугьунарев, рахъдал мучариги лIугьунареб. Малълъухъе хьваде, хьихьухъе рукIа. Марагадал гурга габунибги бан, гаргаралълъул хъаба хъорщодаги лъун. Маргъалалълъул берцинлъи, кунада ххун, цIцIикIкIуна, къадруги дагьлъуларо, ххечIого тунин абун. Маргьабацца кантIула, магъалоялълъ кIвекIула. МаркIачIуде вачIунев кIичIудеги вачIунев, КIичIван тIагъур гIинда бан, богодеги вачIунев. МаслихIаталълъ рекъезарула, мацIцIицца ратIа гьарула. МатIу квешаб бугилан, гIайиб гьелде реххуге, МатIуялда гIайиб щиб, дур куц квешаб бугони. (МатIуялда гIайиб щиб, щайтIадул куц бугони). МатIуялда лъураб тIанкI ххеххго бихьулареб. МатIуялда лъураб цо тIанкIалълъ тIолабго матIу ссурукъ гьабула, цо кIкIухIалай гIаданалъ тIолабго гвай ссуризабула. Маххссара гажиялде ссверулеб, меххтел огьогьоялда лIугIулеб. Маххссара гьабе, бакI бихьун. Маххссара лъаларессе маххссара гьабулареб. Маххссара лълъикIаб, кIиго чи велъараб. Маххссараялълъе гIологи гьересси бищунгейила. Махх кьавуялълъ куна, гIадан ургъалицца куна. Маххул гел цIулал гелалде ккарабила, Маххул нуцIцIа цIулал нуцIцIаялде ккарабила. Маххщалицца нилIеда квен гьаруларо, жинццаго нилIее кьола. «Маххщел бугев» ХIасанил ГIали вукIаго, цоябги оц хъве! Маххщел гьечIев гьабигьан – агьлулъун гьечIев дибир. Маххщелги гьунарги – гьадингояб жо, гьудуллъи бугони, нухда ккола иш. Маххщелги гьунарги ххвалчацца къотIулареб. МахI квешалълъуб тIутI гIемераб. МахIаги гIагIаги гьечIони, мама букIунареб. МахIалда хIал букIаго, хIетI босе. МахIамалъун пер гурев, ГьатIиналъун цIцIан гурев. МахIцараб рекIелIан тIокIкIараб рагIи бачIунареб. МацIцI борхьилги лъан лълъикIаб. МацIцI гьой гуро, гьеб раххссида чIчIоларо. МацIцI гIадамассул кванаге, гIиял кванай. МацIцI кунаро, кваназе жо кье. МацIцI кIалдиб те, кIал богIое те. МацIцI лъаларев цIцIогьор хваги, цIцIар лъаларев тушман хваги. МацIцI лъалев – чода, чол бетIергьан – лъелго. МацIцI ххалатассул гIакълу къокъабила. МацIцIалда гьоцIцIо бугев, рекIелI загьру бугев. МацIцIалда нацIцI барав (МацIцI букарарав чи). МацIцIалда ракьа гьечIеб, гьелълъни ракьа бекулеб. МацIцIалда тIад – гьоцIцIо, мацIцIалда гъоркь – загьру. МацIцIалда хIал кIолаго, кIудиялде ваккуге, Каламалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге. МацIцIалда цIцIам бугев – цIцIанда борохь барав. МацIцIалда чаран лъурай мунги, чарххида цаби ккурай дунги. МацIцIалде гьоцIцIо тIун, гьодилI жо балев. МацIцIид чи чIвала, цIцIогьод оц хъола. МацIцIил цIцIад барав, цIцIогьол гIор щварав. МацIцIихъанасс чияр рукъ, цIа гъвечIого, бухIулеб. МацIцIихъанассул кIал цIцIороги, цIцIогьорассул бер бахъаги. МацIцIихъанассул кIалалдасса цIунаги, цIцIогьорассул квердасса цIунаги. МацIцIицца чи чIвалев, боцIцIуцца вичун восулев. МацIцIххалат, гIакълукъокъ. МачIчIадалда хIанчIида бадиб тIатIи бихьарабила. Маялда мал бани, кьеялда къвал базе кколеб. Маян бихьизе кодобеги кьолебила дуниял, кьурун бахъун, кодоссаги унебила дуниял. Маян кьечIони, дунги хваги, кьураб босичIони, мунги хваги. Маян кьолеб гурони, кьеян гьарулеб къо бачIунгеги. Маян кьураб босичIони, кьеян гьаризе кколеб. Маян кьураб жоялде божи цIцIикIкIараб. Маян кьураб кьагIрил гьан Квине лъачIев хIалихьат, ЦIцIай эххеде, беххебе Хераб гIакдал тIеренчехь. Мегеж танщинав гIакъил гуревила. Мегеж ххалатассул гIакълу къокъабила. Цо цIцIалунчияссда гьедин хъван батарабила тIехьалда. Валлагьин, дир хIакъалълъулIги гьединаб пикру ккезе бегьулилан, зарукьги ккун, ххутIараб мегеж чIурхIулев вукIанила гьев. Магжида парххараб цIаялълъ гьессул михъалги чIурхIун рехханила. Цинги доб тIехьалда батараб абиялда гъоркь гьесс хъванила: «Валлагь, битIарабги букIун буго!» Мегеж хъахIлъанагIан гIакълу ботIролIе. Мегеж хIурул цIун букIаниги кIваричIила, чехь гIорцIцIун бугони. Мегежали дагIнидаги букIунеб, михъалали катидаги рукIунел. Мегежги михъалги гIолелани, Бегунги бихьинчи йикIинаан. Мегежни кIудияб бугоан, гIакълу гьитIинаб гьечIебани. Мегьед кьурай – каранда, керен кьурай – мугъалда. МегIер бичилалде, ххер биче, ххер бичилалде, хьацIцI биче (къадараб ццебе биче, лълъикIаб ххадуб биче). МегIер мегIералде кколаребила, гIадан гIадамассде кколевила. МегIералда нахъаги мегIер батизе бегьулебила. МегIералълъул рикъзи метер бачIунеб. МегIералълъ кквечIеб авлахъалълъ кколареб. МегIер кIкIванищ? ГIор кIкIванищ? (Яшав гьабизеги гIадамазулгун хIал рекъезабизеги гьедигIанассеб захIмат баччизе кколилан абураб магIна). МегIер мегIералде щун бугилан абуни, божа; гIадамасс ругьунаб гIамал тун бугилан абуни, божуге. МегIер радал беге, гIор къаденахъе беге. МегIер цIураб гIиялIа гIангис гIоркIкIен бищарав, хъутан цIурал цIцIаналIа цIцIодегIен балагьарав. МегIергун барщун, гIанкIкI тIубаларо. Мекъаб нух ккурассе битIараб нух бецIцIаб. Мекъаб цIул гIадав, цIулалълъ ноцIцI гIадав. Мекъалда асскIоссанила ритIухълъи унеб. Мекълъи – гIакълуялълъул загIиплъи. Мекъиял нухал гIемер рукIуна, битIараб цо гурони букIунаро. Мекъсса гьабуниги, цин-цин битIун кколеб, битIун гьабурабги цин-цин мекъсса кколеб. Мекъи кколарев гIакъил ватичIев, нух къосунарев ццевехъан ватичIев. Мелъел – лъолъол, лъеретI – гъогъол, гъедел – цIулал, цIцIилкьал – ролIул. Мергил зуни зобалазде рагIарай. Мерго меседилай, тIагъди гIарцулай. Месед балагьизе арав, гьеб бухъулаго, хваравила. Месед букIин гIоларо, меседил квералги рукIине ккола. Месед кьавуялълъ кунареб, гIарац гIонкIкIоцца унареб. Месед лъала биани, чи лъала боцIцIуда гьоркьов, чу лъала рилълъадалъун; квешай чIчIужугIаданалълъул макруялда ххадув щивниги гъоларо. Месед хъванилан, хъирмил багьа холареб. Меседалда асскIоб лъуни, маххги кенчIолебила. Меседалдасса меседил кверал лълъикIал. Меседалълъ ракъи кколаро, гIарацалълъ къеч хьваларо, нахърател богIол гьабе. Меседги какула, кодой щвечIони, Какизе бегьилищ, дуе щвечIони. Меседил бацIцIалъи бииндал лъала, чияссул вацIцIалъи вихьидал лъала. Меседил кверазул багьа гьечIеб, гьел ричун росизе щоларел. Меседил къимат къотIаралъубила букIунеб. Меседил къимат устарассда лъала. Меседил кьили чIваниги, хIама хIама буго, чу чу буго. Меседил лълъикIлъи – кьаву чIвангутIи, чияссул лълъикIлъи – гьересси бицунгутIи. Меседил хIал цIадабила лъалеб, чияссул хIал хIалтIулIила лъалеб. Меседил ца бугев, царал рачIчI бугев. Меседил цаби ругессе гIемер хьимхьидизе бокьулеб. Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас. Мадугьалассул вас вачIун вуго, метер лалде оц биччаларищан гьикъизе витIанин инссуццайилан. - Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас, - ан абун буго мадугьаласс. Метер лал тIамилалде, лалил бетIергьан хун вуго. Кициялълъ бицунеб буго инсанассул гIумру лахIзаталълъги божи бугеб жо гурилан. Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, метер цIцIалилилан дарсалги тоге. Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, регIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге. Метер гьабулелде жакъа ургъе. Метер жужазе бугилан, жакъа рукъ лълъухьичIого тоге. Метер кколелълъул пикру гьабулессул бахIарчи вахъунаревила. Метер къоялълъул хIисаб гьабичIев нахъа пашманлъулев. Метер семиялдасса жакъа рагъи лълъикI. Метер щолел гьаналI пурщабаздасса жакъа щолел хъабхъилI пурщабиго лълъикI. Метералде тараб ссезеялде нахъбахъарабила, ссезеялде тараб гьоркьоб арабила. Метерго хвелел гIадин динги гьабейила, кидаго хвеларел гIадин дунялги гьабейила. Метерисселълъул пикру гьабуларессул жакъассебги букIунареб. Метерисса бохха, цер! (Билълъидалго бохха, цер!) ЦаратIинчI ун букIун буго къватIибе. Гьелда гIодоб батун буго цо нус. Гьеб берцин бихьараб царатIинчIалълъ нус кIкIун биччан тун буго. ЦIакъ боххун рокъобеги бачIун, жинда батараб носол хIакъалълъулI эбелалълъе бицун буго. - Кибхха гьеб бугеб? - Дицца гьеб къулчIчIана, эбел? - Метерисса бохха, цер! Метерисса царатIинчI, чохьол унтиги бахъун, хун буго. Мехх щварал къинлъила, къо щварал хвела. Меххтараб гIонкIкIоцца катида инссул цIцIар цIеххарабила. Меххтарав чияссе кьураб гIакълу – гIурулIе реххараб чIимихх. Меххтарассул дагIба-рагIи гIемераб, дандеяссул зарул пирххи гIедераб. Меххтарухъанассда яхI букIунареб, хIинкъарассда нич букIунареб. Меххтизабуни цIцIелжо бацIгун багъулебила. Меххтун велъила, вигьун гIодила. Микк чIаралълъуб микк бижула, чинари чIаралълъуб чинари бижула. Милат кIудияб букIунила, гьелълъул тарихх кIудияб бугони. Милаталда тIад вугев чияссул бетIер гьегьгIанаб букIине кколеб. Мимидулеб катихъе кидаго гIункIкI щолареб. Мина базе захIматаб, биххизе бигьаяб жойила. Мина босулелълъул, мадугьал цIеххе. Налъукьеги ккун, цоясс мина бичулеб букIун буго. Гьелълъул багьа чIчIезабун буго къого томен. Минаялълъул бетIергьан чIчIун вуго жинцца гьеб кIикъого томеналдасса гъоркье кьеларилан. Босулев чи чIун вуго къого томеналълъул багьаяб минаялълъухъги кIикъого томен абиялълъул магIна жинда бичIчIунарилан. Бичулесс гьессие жаваб кьун буго: къого томен рукъзабазухъги кколила, къого томен мадугьалассухъги кколилан. Босулев чIчIун вуго минаялда цадахъ мадугьалги вичулевлъи жинда рагIун букIинчIилан. Минаялълъул бетIергьанасс абун буго: рес букIарабани, азарго томен дуцца кьуниги, мадугьалассдассаги минаялдассаги жив ватIалъилароанилан. Ургъун вихьилилан, мина босулев нахъе ун вуго. Сапаралдасса вуссарав мадугьалассда бицун буго гьессул мадугьаласс рукъзал ричулел ругилан. АхIун рокъовегун, гьесс мадугьалассда гьикъун буго: кигIан налъийила дуда бугеб, щайила дуцца рукъзал ричулел ругел? Мадугьаласс, киссинисаги бахъун, гьессие къого томенги кьун буго, дагьабги хIажалъани, нахъеги вачIаянги абун буго. Цо заманалдассан дов чи вачIун вуго жиндир хIукму кканин, дуцца абураб багьаги кьун, рукъзал росизеян. Рукъзабазул бетIергьанасс гьессие мадугьалассулги жиндиргоги ккараб бицун буго. Дур мадугьалассул багьа къого томен букIун гьечIин, азарго букIун бугилан абунила гьесс рукъзабазул бетIергьанассда. Минуталълъ нахъа ххутIарав сагIаталълъ ххадув гъоларев. Мискинаб рукъалълъул мискинлъи баххчулеб жойила гIака. Мискинав вацассдасса бечедав ццинагIал вокьулевила. Мискинав вачIун, гьарун ина, залимав вачIун, бахъун ина (Мискинав вачIун, гьарун инебги лъаларо, залимав вачIун, бахъун инебги лъаларо). Мискинав ваццгIал – ццинагIал, бечедав ццинагIал - ваццгIал. Мискинав вукIа, бечедав вукIа, доре унелълъул – цого мусру. Мискинавилан росулI рагIизегIан, къарумавилан цIцIоралде рагIизе бокьилила. Мискинассде гьойги ххеххго бортулеб. МискинавгIан чи яхI-намус цIцIикIкIарав вукIуневила. Мискинассе заз гIадав, залимассе нах гIадав (ХIалимассе – хъиру, хъачΙассе – квасквас). Мискинассе къваригIиндалила гIор къунеб. Мискинассеги вакъарассеги бокьараб тIагъур данде кколебила. Мискинассул – гьари, бечедассул – хIал. Мискинлъаниги рагъулел росс-лълъади, бечелъаниги рагъулел. Мискинлъи баххчулев бечелъуларев, бечелъи ххирияв жо гIун холарев. Мискинлъи бугила балагь, гIагарлъи нахъе цIцIалеб, тушманлъи тIаде цIцIалеб. Мискинлъи лълъикIаб жо ани, бищун ццебе дибирасс жиндиего гьарилаан. Мискинлъи рогьо гуро, бечелъи гьунар гуро. Мискинлъиги ракъиги – яццгIалзабийила. МискинлъичIого гьудул лъаларевила. Мискинлъиялда велъулев, вежа-велъун вахъинчIев. Мискинлъиялдасса бакIаб гьир гьечIеб. Мискинлъиялълъе дару – хIалтIийила, хIинкъиялълъе дару – таваккалила. Мискинчи бечелъани, кIиго чIчIужу ячуней, Бечедав мискинлъани, цIцIогьодизе лIугьунев. Мискинчи вукъизе кьураб нусго гъурущалдасса чIаго вукIаго гьессие кьураб гъурущ бергьунебила. Мискинчи - живго мискинав, къарумассул – ракI мискинаб. Мискинлъи – росдал балагь, ссадакъа – ракъул балагь. Мискинчи тIадеялълъул бечедав. Мискинчи ххасало лъалев. Мискинчи ххиялаз бечелъулевила. Мискинчиясс бечелъи хIехьолареб, бечедав чиясс мискинлъи хIехьолареб. Мискинчиясс ссахIие гIоло мегIер бегулеб. Мискинчияссда велъуге, бечедассде хьул лъоге. Мискинчияссе дару – хвей. Мискинчияссул букIун буго, гьелълъул мугъалда хур бекьун, хъизан хьихьараб цо гьирил чу. Цин-цин, дагьабниги тIаде гьан бахинеян, гьесс гьеб гъолеб букIун буго магIарде. Чолни гьод цIцIоролалдего, гъарим мискинчи ине кколев вукIун вуго гьеб нахъе бачине. БетIергьанчи вихьараб меххалълъ, чу хIихIидулеб букIун буго. Ассги жаваб кьолеб букIун буго: «ХIи-хIи-хIи! - щиб букIинеб, дир гъарим, я мун хваги, я дун хваги! Гурони нилIее рахIат гьечIо!» Мискинчияссе квекIен гIемераб, бечедав чияссе кумек гIемераб. Мискинчияссе цIцIамуда ччураб ххинкIги гьуинаб, бечедав чияссе гьоцIцIоги цIцIекIаб, цIцIибилги кьогIаб. Мискинчияссул багьа – къого куй, нуцалчияссул багьа – нусго куй. Тариххаз гIемерал мисалаздалъун нилIеда бицуна ракьул бетIергьабаз кигIан цIакъ жидерго къимат гьабулеб букIараб, мискинчи кигIан къимат гьечIевлъун, гIодовегIанавлъун гьез рикIкIунев вукIаравали. Ракьул бетIергьабаз жидер балъазда, ххассал балъазда, рихьизарулел рукIун руго лагъассул, узденассул, нуцалчияссул батIи-батIиял къиматал. Гьел къиматал хIисабалде росулел рукIун руго чIвай-хъвей, лIукъа-къотIи ккараб меххалълъ рахъулел рецIелазеги. Мискинчияссул бечелъи – сахлъи. Мискинчияссул гьудул дагьав, рохь гьечIеб магIарда чан дагьаб. Мискинчияссул нуцIцIида нахъа жул букIунебила, рокъобе бачIараб бечелъи лълъухьун реххизе. Мискинчияссул рокъоб къецц гIемераб. Мискинчияссул рукъ – росу рагIалда, апарагассул хоб – хабалазул рагIалда. Мискинчияссул тушман гьечIев, лълъиегони вокьуларев. Мискинчияссул хур хханассул мегIералда бащадаб. Мискинчияссул хIорго ххутIарал гъудал. Мискинчиясс жиндирго хуриб бекьун букIун буго цIцIороссоролI. Гьава-бакъ рекъараб сон букIиналълъги, чIаран, хъуссун лълъикIго хъулухъ гьабидалги цIцIороссоролI цIакъ хIалигъун бижун бачIунеб букIанила. Мискинчиясс пикру гьабунила: исана дие хурисса лълъикIаб бачIин щвезехъин буго. ТIаде-гъоркье чагIиги рачIина, киназегони гIурал гъудал дир къавулI гьечIо. Валлагь, бачIин бакIарилалде, дун рохьове гъудал гьаризе ун лълъикI! Жиб-жиб къоялълъ хъулухъ гьабулеб букIараб хурги жибго тун, мискинчи, гIащтIиги бикIароги босун, рохьове къокъанила. КъотIанила цо лъорил гъветIги, гьарунила гIезегIанго гъудалги. Мискинчи тIад вуссиналде, рохьил болъоназ пасат гьабун батанила хур. Бахъун чIараб цо хIуби цIцIороссоролIулги тун гьечIоанила, бухъ-бухъун бан хурги хвезабун бугоанила… Гьеле гьедин хIорго ххутIун руго мискинчияссул гъудал. Мискинчияссул яс берцинай лIугьаги, вас лебалав лIугьаги. Михъида квер бахъулеб меххалълъ гьабичIеб жо магжида квер бахъулеб меххалълъ гьабун бажарулареб. МичIчI бекьаралълъуб – мичIчI, жух бекьаралълъуб – жух. МичIчIида мичIчI бижулеб, жухида жух бижулеб. МичIчIил кьолбода кьагIрил ххер бижуларо, кьурул нохъода гIарац-месед бижуларо. Могоро бан гуревила дибир реххулев. Дибирассда лъазабун буго метер бачазул иргаялде айилан. Дибирассул чIчIужу гIелгун къаццандизе лIугьун йиго, дибир бачазул иргаялде витIулеб гIадат гьечIилан. - Мун юцIцIун чIчIа! Могоро бан, дибир реххуларев, бачазул иргаялде аян лъазабураб гIола, - ян абун буго дибирасс. Могьое – гьали, гьанае – кватIи. Могьол хIурмат гьабурав вакъун ххутIуларев. Мокъ гьечIеб гIанкIу гIадин ххутIун вугила. Мокъ ккун босизе кини гурел, квер ккун бачине лъимер гурел. Мокъиде хъазги бахинабун, хIелкида къинлъеян абуге. Мокъокъ буго къвакъвалеб къасси бертин бугилан, микки буго гъулгъулеб цадахъ жибги бачеян. Мокъокъида чIор речIчIани, чIоролида зунтIулеб. Мокърукь бетIер тункичIого, гIакълу щолареб. Моххмоххалълъул нахалда чIоролодул нах бахунареб. Моххмоххги кIудияб, квасги ризаб куй букIунареб. Моххмоххиде хьулги лъун, хьолбодассаги ватIалъун. Моххмоххил маргьа бице, дада, моххмохх кварал гIадин рукIине. Моххрода хоно бухьунге, оцода данде баси баге. МоцIцI бугони, цIцIваби щай? МоцIцI канлъулеб рещалъидал, яс берцинлъулей балугълъидал. МоцIцI нилIехъан бугони, цIцIвабзазул хIал кколаро. МоцIцIиде гьабураб щвартIалдеги биххулеб. МоцIцIроде хIапдолеб гьой гIадин. МоцIцIрол гьумералдаги тIанкIал рукIунел. Мочол мугь гIанассел нилI рокьани, оцол бергIанниги нилIееги рокьулелила. Мугъ бекаяссул эбел, вас гьавулей йикIарай, оц гIорцIцIизе чIарги хун, чIвараб накуги унтун! Кицилъун лIугьарал ххалкъалълъул рагIаби руго хIалихьатав васассде абурал. Абун ратизеги бегьула гьессие гIоло наку чIварай эбелалълъ. Кициялълъ бицунеб буго некIого нилIеда кIочон тараб цоги жоялълъулги. РацIцIалъи букIиналълъул мурадалда, хIара чIварай чIчIужугIаданалда гъоркье реххулеб букIун буго бакъвараб чIарал квацIи. ЧIарахъан абураб рагIиги гьелдассан бачIараб букIине ккола. Мугъ биччичIони, хур биччулареб. Мугъ ссверунги чехь бугев. Мугъ ххалатаб чу гуро, чехь кIудияб оц гуро. Мугъ чIвазе бакI бугони, зарул пирххи букIуна. Мугъ чIвазе бегьулев гьудулассде щвараб жо щибго гьечIеб. Мугъалда квер бахъулев, чахьалда малал ралев. Мугъалълъ баччиялдасса чехьалълъ баччи лълъикIаб. Мугъзада чед букIаго, чехь бакъизе биччаге. Мугь бищун, бечелъуларевила, борч тIубан, мискинлъуларевила. Мугь гIемер гьализабе, гьан кватIизегIан гьагIдалI те (Могьое-гьали, гьанае – кватIи). Мугь-мугь ккун реххунила гIанххрил мигьирги гIолеб. Мугь цIубайдал, тIор къулулеб, пихъ бакIлъидал, гъветI къулулеб. Мугьалде мугь реххунила къали гIолеб. МугьгIаналълъул тIагъур гьабуге, тIутIгIаналълъул пил гьабуге. МугIрул гIариялдассаги цIунаги, гIи гьечIеб хъвехъариялдассаги цIунаги. МугIрул гIундул цIцIодорал, гIалххул берал цIцIодорал. МугIрул каву гIатIидаб, гIалххул берал цIцIодорал. МугIрул ракьандаги гIурул рагIалдаги чи вакъичIевила. МугIрул рохьаз берцин гьарула, рукъ лъималаз берцин гьабула. МугIрул рукъ – буртина, рукъалълъул хIуби – чIчIужу. МугIрул рукъги рукъалълъул хIубиги гьаруларебила. Цо гIандиссев буртабалълъе ун вукIанила. Цо лъалев-хъвалев буртисесс гьассда жиндирго гьобол цIехханила. Дагьал къояздассан жив ГIандиве вачIине вугин ва гьоболассда буртина гьаризе бугиланги бицанила. ГIандиссев рокъове щванила. Буртиссессул гьоболассда гьев буртиссев вачIинехъин вукIинги гьесс буртина гьаризехъин букIинги бицанила. Гьарани кьелеб батилаххаян гIандиссессги абунила. Цо анкьидассан буртиссев вачIанила ГIандиве. Цо кIудияб къваригIелго гьечIого вачIиналълъул, гьоболассда гьаризе цо жо букIиналълъул бицанила. ГIандиссесс, буртиссессул бицунеб жоги гьоркьоб къотIизабун, абунила: - ЛълъикI буго, гьобол, бокьараб жо гьаре, кьела. Цинги мугIрулги рукъги рукъалълъул хIубиги гьаризе бегьуларебхха. Хъассулаго гъванщагун, буртинаялде букIараб хьулги хIорлъун, буртиссев нахъ вуссун ун вуго. МугIрул хьон битIаги, хьиндал пихъ битIаги. Макъан – Гъуниб, кьурдулел – Ххунзахъ. МукIурлъиги – бахIарчилъи. Мун бечелъизегIан бечедги чIчIечIин, Бичилищ, эбелхвад, нухда гъоркьа хур? Мун, букIинчIеб рокъоб рекъечIеб кето, нухтIа битIун билълъа, батIергьанчихвад. Мун вахине гохI балагьулев дун – дун реххизе кIкIал балагьулев мун. Мун вихьила, дун йихьилаялълъул лълъикIаб жо кколаро. Мун вичIчIуларезде ургъел бикьулареб. Мун вокьулев чийилан рекIелI бугеб бицунге, дуцаго цIуничIеб жо чияцца цIунулареб. Мун вокьулессде рокьоялълъ гIагарлъе, вокьуларессдасса къол нухалълъ рикIкIалъе. Мун гъалбацI ватани, гIадамалги гIанкIкIал гурел. Мун гIадиналин гIадамалги рукIунел, дуе гIадинин гъозиеги бокьулеб. Мун, заманалда рекъон, хьваде, заман дуда рекъон хьвадулареб. – Мун кибе, гьитIинаб? – КIудияб балагьизе. Мун кида биххилебилан гьикъарабила къадада. ХIарщуда гьикъейилан жаваб кьурабила къадацца. «Мун кида хвелеб?» – ан гьикъарабила къохьода. «Нахуда гьикъе», - ян жаваб кьурабила къохьоцца. Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIунин, дурни устарги киданиги бахъинчIилан абурабила бацIицца гъотIоркIоялда. Рехъалълъа кьегIерги хъамун, тIурун унеб букIанила бацI. Цо гъотIокье щвейгун, гьелда чIинхъи чIванила. ГъотIода чи вугиланги ккун, гIодобе кьегIерги реххун, тIуранила бацI. Дагьаб добегIан щвейгун, лъалхъизеги лъалхъун, нахъбалагьанила. ГъотIода чи вукIун гьечIила, роххти борлIулеб гъотIоркIо букIун бугила. «Дуда чIчIегIераб къо чIчIад! – ан абунила бацIицца гьелда. – Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIуна, дурни устарги киданиги бахъинчIо!». ГъотIоркIоялълъ данде гьадин къотIанила: «ЧIчIегIераб къоги, бацI, дудаго чIчIаги! ГIумру чахъаби рикъулаго аниги, дурги гIияхъан лIугьинчIо». Гьалда щай жиб кIалъарабан ракIалдеги ккун, бацIицца ххазабунила. – Мун кисса? – Жеги чIчIужу ячинчΙо. Мун къватIиссайилан дир къеццен гьечIо, РосулI къотIуларо къебедасс месед. Мун кьижун вукIунев, дур тушман кьижуларев. Мун кIодо гьавурав дуццаги кIодо гьаве, даим кIодолъи жиндиего къваригIарассда асскIовеги къаге. Мун кIочон тезегIан гIемерги кьогейила, Аллагь, дие боцIцIи, гIадамал гурхIизегIан дагьабги кьогейила. Мун лъелго вилълъине ккелароан, чода кIалдиб таргьа балебани. Мун лълъикIабилан абуни, хIамикIертги боххулеб. Мун лълъил гьакида рекIаниги, кечI гьессул бакъаналда ахIе. Мун мегIер ватаниги, цогидал мугIруздеги мугъчIвай гьабе. Мун хвела, дур лълъикIлъи кидаго хвеларо. Мун хIинкъизе кколаро – ккезе биччаге мунагь; гьеб чуризе кколаро – гьабуге ххияналъи. Мун цер ватани, дунги царал рачIчI ккола. Мун цIакъабилан абуни, хIамикIучIги кьурдулебила. Мун цIцIализе унелълъул, дун цIцIалун вачIунев вукIана. Мун чи ватани, чухъа ретIараб гIоларо, чорххолI гIадамассул тIабгIги букIине ккола. Мун чи ватилилан восун вукIана, ТIад пихъ бижулареб чинаридул гъветI. Чи мун вугилан ккун, восун вукIана, Чурун бацIцIунареб цIцIел квасул турут. Мунагь бугейила, буйзе ккани, кIудияб буйила. Мунагь камурав чи вукIунарев, гIайиб камураб квен букIунареб. Мунагьазул унтиялълъе дару – тавбу гьаби, чорххол унтиялълъе дару – кванил низам чIчIезаби. Мунагьго гьечIей яс ялагьулаго, чIчIужуго щвечIого, ххутIаравила. Мунги – ххан, дунги – ххан, хIама лълъицца гьекъелеб, хуриве щив инев? Мунилан холев дун, дун хабалалълъе восагиян мун. Мунго дудаго лъачIого, чияде рагIи абуге. Мунго дуццаго! Вехь вукIаравила хъощнив ххинкIал гьарулев. БачIарабила гьессда асскIобе цо щайтаналълъул тIинчI. Гьеб гогьаб тIанчIицца гьессул лъел цIураб парччи бегизабурабила, хьагинибе лахI бортизабурабила. Вехьасс кигIан лълъикIаб бицаниги, гьелълъ вехь цо хIалалда течIевила. Ццин бахъарав вехьасс щайтIаналълъул тIинчI, бан малгун, къватIибе реххарабила. ЧIичIидулаго гьеб лIутун унеб меххалълъ, ахIарабила вехьасс: «Дицца гуро мун, мунго дуццаго!» – ян ЧIичIидулаго жидер тIинчI бачIунеб бихьараб меххалълъ, щайтIабазул ахIи бахъарабила. «Лълъица мун? Щиб дуе?» – ян вехьассул хъош бугеб рахъалде рекерулел рукIаралила. ЩайтIаналълъул тIинчIалълъ жаваб гьабурабила: «Дунго диццаго, дунго диццаго!» - ян. Мунго дуццаго бугеб меххалълъ, щай ниж ахIуд рахъинаруралан, щайтIаби, тIинчIги буххулаго, нахъ руссаралила. Мунго дуццагоги веццуге, гьечIеб гьунаралдассаги чIухIуге. Мунго гьалаг гьавулеб гьаваялда рекIунге. Мунго тIассайилан мунги ватила, тIассатIохда рукIун, дудаго релъулел гIадамалги лъаларого. Мунищ наиб, дунищ наиб? Гьадин абула, гIагарав чияссул хIакимлъиялде мугъги чIван, жидерго хIакимлъи билълъинабизе бокьулел, кколарел ишал бетIералде росулел гIадамазул хIакъалълъулI. Аби бачIун буго Шамилил наиб Инквачилассдассан. Гьессул эбел лIугьуней йикIун йиго гIарзалълъ рачIаразул ишалда гъоркьое. Наибасс эбелалда абулел рукIун руго гьал рагIаби. Мурадалде щун, щивниги хвечIевила. Муса аварагасс Аллагьассда гьарарабила жинде гIадамал гаргадизе риччагейилан. Аллагьасс абурабила жиндего гаргадизе гьукъуларел гьел дуде гаргадизе кинин гьукъилелилан. Муса хурив вугониги, хурив Муса вугониги – цого жо. МутагIилзабазул цIцIалиялдасса цIцIогьол гьанал цIураб къвачIа бокьила. МутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал, гIухьбиги рикIкIани, гIантал гIемерал (хварал гIемерал). МутагIиллъун вас вугесс яс гьечIилан абуге. МутагIиллъун вугев васассдассаги россассе кьурай ясалдаги гьимун ца бихьуге. МухIума хвеялдасса ГIума хвейго лълъикIила. Мучариги чед гуро, чухъаги ретIел гуро. Мухь босиларилан аби – устарассулги гьересси, россассе инарилан чIчIей – ясалълъулги гьересси. Мухь гуреб жо кьун, вехь гурев чи тоге. Мухь щолареб хIалтIухъ баркалаги – мухь. Мухьни кьеларин, баркалагIаги щай кьолареб? МухIканлъи – шартI (МухIканлъи шартIилан, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх барабила). «МухIканлъи шартI» абураб кици тола, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх баялда бухьинабун, релъа-роххун. Гьебни буго мухIканлъиялълъул хIакъалълъулI бугеб гIакъилаб кици. Хханасс пикру гьабулеб букIанила, жиндир вазирзабазда гьоркьосса кинавдай пуланаб вилаяталде хIакимлъун витIилаян. Гьесс хъулухъчагIазда буюранила, жиндир тIотIола гъадринибе тIун лълъимги лъе, къотIараб рахъги гъоркьеххун гьабун, гьенибе бащдаб гIечги реххеян. Цинги ахIанила цо вазир. Гьикъанила гьессда гьаб гъадриниб бугеб жо щибилан. Вазирасс жаваб кьунила гIеч бугилан. Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила цоги вазир. Гьессиеги кьунила гьагъабго суал. Гьессги жаваб кьунила лълъелIе реххараб гIеч бугохха, хханилан. Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила лъабабилевги. Гьессиеги такрар гьабунила гьагъабго суал. - МухIканлъи – шартIан абун гьечIищхха, кIудияв ххан, – анги абун, лъабабилев вазирасс цо гьитIинаб гIучI балагьанила. Цинги, бегунисса реххун, битIунисса реххун гъадриниб бугеб жогун, хханассе кьучIаб жаваб кьунила: «Гьаб бугохха, ххан, лълъелIе реххараб бащдаб гIеч». Хханасс гьев вазир витIанила доб вилаяталде хIакимлъун.
- shsh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ХI \ 1. ХIабургъараб гъуй гъваридабилан кколебила. 2. ХIабургъараб меххалълъ гIор бахунареб. 3. ХIайван кIал гIебаб лълъикIаб, гIанкIу гозо бегIераб лълъикIаб. 4. ХIайван – тIассан чараб, гIадан – жаниссан чарав. 5. ХIайван хвани - ракьа, чи хвани - ишал. 6. ХIайван хIайваналда релълъараб, гIадан гIадамассда релълъарав. 7. ХIайваналда ччехI ккани, риидал кьаралъула, рукъалда ччехI кканани, чанги сон къваригIуна. 8. ХIажалъиялълъ малълъула, магъалоялълъ квегъула. 9. ХIажат гьечIеб ххабаралда ххадувги лIугьунге, кколареб ишги бетIералде босуге. 10. ХIажизабазулги рещтIунгегийила бо. 11. ХIажигIисал хъулухъ. Кици бижун буго наибассул гьобол ХIажигIиссал баркала гьечIеб хъулухъалда тIад. Наибассе бокьун букIун буго йокьарай гIадангун кIалъазе. ЦIакьго наибассе хъулухъ бацIцIад гьабулев чи хIисабалда, ХIажигIисса гьессдасса ватIалъун гьечIо. Наибассе йокьулелда кIалъазе рес ккун гьечIо. Гьединаб хъулухъалда авараз абула ХIажигIисал хъулухъан. Кколареб иш бетIералде босарав чияссдеги абула кIудияв ХIажигIиса вугилан. 12. ХIажияссул ракI ХIавал кIалдиб. 13. ХIайваналцин рагъизе тIами Аллагьасс гьукъараб жойила. 14. ХIакимассда ццевессанги унге, хIамида нахъассанги унге. 15. ХIакимзаби рихьидал, «рорчIами!» – ян вортулев, цогидазда бер чIвайдал, рихьичIеб ххвел гьабулев. 16. ХIакимассул витIи – чи ватIа гьавунгутIи. 17. ХIакъаб рагIиялълъул къимат холареб. 18. ХIакъги къоги – къарал бугъие. 19. ХIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодоссан. 20. ХIал бугев – кидаго ххан, хIаликъав – кидаго лагъ. 21. ХIал бугессул гIанкIудул хоноялълъ хIал гьечIессул гIурул хоно бекулебила. 22. ХIал гIоларев хIилаялълъ бергьунев. 23. ХIал гIолеб гьечIони, хIилаги бегьулеб. 24. ХIал кколареб гьудуллъи ххалат ххутIулареб. 25. ХIал лъаларев гьудул – бекичIеб цIулакьо (ХIал лъаларев гьудулги бекичIеб цIулакьоги цого жалила). 26. ХIал лъаларей чIчIужугIаданалда тIаде иналдасса рекIараб ххвалчада тIаде ин лълъикIила. 27. ХIал лъаларессухъеги кьогейила налъи, хIал лъаларессухъаги босугейила. 28. ХIал хъубал гIадамал рукIинчIелани, ракьалдаги алжан букIинаанила. 29. ХIалакъаб жоялълъул гьан кьарияб бакIалдасса лълъикIаб, кьарияб жоялълъул гьан хIалакъаб бакIалдасса лълъикIаб. 30. ХIалакъаб куйдул боххалдасса кьарияб чахъдал ратIа лълъикIаб (ХIалакъаб цIцIеялдасса кьарияб бурутIго лълъикI). 31. ХIалакъаб чахъдал гьаракь рагIулареб. 32. ХIалакъаб чол гьод ххалатаб, гьекъарав чияссул ххабар чIамучIаб. 33. ХIалакъаб чу – квешаб чу, кьарияб чу – лълъикIаб чу. ГIодор чIчIарал гIадамазда ццевессан анила цо рекIарав. - Чол цIакълъи! Берцинлъи! – ян киназго беццанила нухлулассул чу. - Долълъул кьаралъигихха, дир лъимал! – ан абунила тIириги канлъи бихьуларев херав чияссги. Канлъиги бихьулареб меххалълъ, дуда доб чу кьарияб букIин кин лъарабан абигун, кIудияв чиясс гьадаб кици тIамун буго. 34. ХIалалав вакъуларо, бикъарав гIорцIцIуларо. 35. ХIаликъассул рагIи кIудияб, къокъассул гIамал кIудияб. 36. ХIалил хIалтIиялълъ черхх чIвалеб, хIалтIуларесс рукъ чIвалеб. 37. ХIалимаб чахъу лъабцIцIул къунцIулебила. 38. ХIалимассда къвал бай, къел кколев довегIан те. 39. ХIалимассе хъиру гIадав, хъачIассе квасквас гIадав. 40. ХIалихьалъиялда цадахъ хIалихьалъи хьвадулебила, бихьинчилъиялда цадахъ бихьинчилъи рекъолебила. 41. ХIалихьатав васассдасса, гьевги хун, чIчIикIараб бахъухъго лълъикIила. 42. ХIалихьатав ватидал, чияссе гьабизессеб тамихI – реххунтей. 43. ХIалихьатав гьудулассдасса бахIарчияв тушманго лълъикIила. 44. ХIалихьатаб гьой чурутIа багъула, хIалихьатав чи гъасстIа вагъула. 45. ХIалихьатав ххан ккани, улка биххулеб, хIалихьатав гIел ккани, магъил гIадлу биххулеб. 46. ХIалихьатав чияссда хIал лъазе тоге. 47. ХIалихьатав чияссухъа босараб хханида жаниб багIархоно батуларебила. 48. ХIалихьатассул рекIелI – ххиянат, бахIарчияссул рекIелI – ритIухълъи. 49. ХIалицца бахъараб ритIухълъи тIоххол къайи гIадаб жойила. 50. ХIалицца гIияда нахъе битIараб гьойца гьумер хъахIаб жо гьабулареб. 51. ХIалихьатав чи бусен борлIун вилълъизегIан чIаго ххутIагийила. 52. ХIалихьатав гьудулассдасса яхI бугев тушманго лълъикIила. 53. ХIалицца базабураб какил кири букIунареб, хIалицца гьабизабураб хIалтIуда гугьар букIунареб. 54. ХIалтIарассда лъала ххинкIазул тIагIам. 55. ХIалтIи балагье, хIалихьалъи баччуге; хъантIун кванаге, дандеяссухъги валагье. 56. ХIалтIи батарассда боцIцIиги батулеб. 57. ХIалтIи битIун унаро, бутIрул лълъикIал гьечIони, гьобоги ххеноларо, жонода тIад гурони. 58. ХIалтIи бокьарасс гьобо бай, ургъел бокьарасс гIи хьихье. 59. ХIалтIи бокьизе лъабго сон къваригIунеб, кIкIухIал лIугьине лъабго къоги гIолеб. 60. ХIалтIи бокьуларесс кьалги хIехьолареб. 61. ХIалтIи буго ракIалълъ гьабулеб жо. 62. ХIалтIи гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб маххщел, дагьаб жо гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб заман. 63. ХIалтIи гьечIев гIалимчи – цIцIад балареб накIкI. 64. ХIалтIи гьечIессе къо ххалатаб, рокьи ккарассе сордо ххалатаб. 65. ХIалтIи гьечIессул чед гьечIеб, чед гьечIони, гIумру гьечIеб. 66. ХIалтIи гьечIони, лълъикIлъи гьечIо, лълъикIлъи гьечIони, дунял гьечIо. 67. ХIалтIи, жаналда рекъон, гьабе, квен, чехьалда рекъон, кванай. 68. ХIалтIи катил гIадав, кванай хIамил гIадав. 69. ХIалтIи кутакалълъ гьабулареб, маххщелги къваригIунеб. 70. ХIалтIи къолеб, гIадамал бергьунел. 71. ХIалтIи лълъикIаб ххеххдаричIеб. 72. ХIалтIи лълъикIавги веццулев, хIелхIедаравги веццулев. 73. ХIалтIи – рухI гьечIеб жо. 74. ХIалтIи рихарассул гIусал-цабиги чIчIола (Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо). 75. ХIалтIи тIагIаралълъ гIомо борлIулеб. 76. ХIалтIи тIагIун, чи холарев (Дир инссуцца нусиялда ххадур сонал ран рукIанила, гьессулни хIалтIи лIугIун букIинчIила). 77. ХIалтIи тIагIуна, гьабичIого тараб меххалълъ. 78. ХIалтIи тIагIуна, нилI хвараб меххалълъ; чи регIула, ункъабго къоно чIвараб меххалълъ. 79. ХIалтIи чIалгIарассул цаби чIандоларел. 80. ХIалтIани маххги гвангъулеб. 81. ХIалтIарассул габур биццатаб, хIалтIуларессул гьури биццатаб. 82. ХIалтIизе ккани – херав, хвезе ккани – бахIарав. 83. ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабе. Эменги васги рекьуда рукIанила. Вас ццеве вилълъунев вукIанила, инссуцца пурццигIоркь ккун букIанила. Васассда хIалтIи ххеххгого чIалгIанила. Гьесс оцал рахънисса къватIире ине толел рукIанила. Эмен гьессде семулев вукIанила. - Дида дур лIугIиго гьечIеб хIалтIи чIалгIана! – янги абун, вас лIутун унев вукIанила. - ЧIчIа! – ян ахIанила инссуцца. – ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабизе вачIа! 84. ХIалтIичIони, хIалтIи букIунаро. 85. ХIалтIичIони, чIамулареб, чIамичIогоги гIолареб. 86. ХIалтIуда маххссара лъалареб, маххссараялълъ квен кьолареб. 87. ХIалтIуда рекъарабила мухьги букIунеб. 88. ХIалтIудасса хIинкъуларессдасса хIалтIи хIинкъулебила. 89. ХIалтIуде унелълъул ццевехъан – мискинчи; берталълъе унелълъул ццевехъан – бечедав чи. 90. ХIалтIуе – квалквад, квание – гъалбацI. 91. ХIалтIуе – кечI, кинидае – лаилагьа. 92. ХIалтIуе – пахъла, квание – хъанхъра. 93. ХIалтIуде – хьадар, квание – гIедер. 94. ХIалтIул квешлъи – гьабунгутIи, гьудулассул квешлъи– хIалккунгутIи. 95. ХIалтIул лълъикIлъи лIугIидал лъала, чияссул лълъикIлъи хведал лъала. 96. ХIалтIул пайда гьечIеб, пикру гьечIони. 97. ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 98. ХIалтIул ссвак хIалтIун гурони бахъулареб. 99. ХIалтIул ургъалида таги. 100. ХIалтIулев кванарав, хIалтIуларев хIацIцIадулев ххутIарав. 101. ХIалтIулел кверал гурел хъубал, хIалтIуларелин. 102. ХIалтIулел ратаралълъув хIалтIе, кваналел ратаралълъув кванай. 103. ХIалтIулIги кванилIги – ссундулIго гIорхъи букIине кколебила. 104. ХIалтIун бечелъарав гIорцIцIун хваравила, ххиялаз бечелъарав вакъун хваравила. 105. ХIалтIун бечелъула, бихьун цIцIодорлъула. 106. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIаб. Эбелги васалги хурир хIалтIулел рукIанила. Къалъуда эбелалълъ гьезда гьикъанила: - ГьабсагIат кьолеб ридигун ххинкIищ бокьилеб, бакъанида кьолеб хIаливайищ бокьилеб? - Бакъанида кьолеб хIаливаялдасса гьанжего кьолеб ридиги ххинкIги бокьила, эбел, – ан абунила цоясс. - Диени бакъанида кьолеб хIаливаго бокьила, – ян абунила цойгиясс. Бакъанида, хIалтIи лIугIун ххадуб, эбелалълъ кIиабилев васассда ццебеги гъобго ридиги ххинкIги лъунила. - ВахI, эбел, бакъанида хIалива кьезе гурищ къотIи букIараб? – ан абунила гьесс. - ХIалтIи лIугIун ххадуб кванараб ххинкI хIаливаялдасса гьуинаб букIуна, дир вас, хIал бихьея цо, – ян абунила эбелалълъ. - БитIараб букIун буго, эбел. ХIаливаялдасса гьуинаб ххинкIги буго, рахьалдасса тIагIамаб ридиги буго, – ян абунила васасс, гъираялда ццебе лъураб квенги кваналаго. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIабан кици рехханила эбелалълъ. 107. ХIалтIухъанассдасса хIалтIи хIинкъулеб, бахIарчияссдасса гула хIинкъулеб. 108. ХIалтIухъанассе мухь гьессда бараб гIетI бакъвалалде кьейила. 109. ХIалтIуцца хIалтIи малълъулеб, боцIцIуцца мацIцI малълъулеб. 110. ХIалхьи гьечIеб чIчIеялдасса чIчIей гьечIеб рилълъинго лълъикI. 111. ХIалценги, цIаги, рокьиги раххчун бажаруларелила. 112. ХIама бегьичIони, хIамихъ босараб бегьулеб. 113. ХIама бергьинегIан, чу биччалареб. 114. ХIама биларассулила къоги билулеб. 115. ХIама бугони, гъалдибер камиларо. 116. ХIама букIана – кьили щвечIо, кьили букIана – хIама щвечIо. 117. ХIама гIундуздассан лъалебила, гIабдал каламалдассан лъалевила. 118. ХIама кьололаго, кьолокьги чIвалеб, кьили бахъулаго, ххадубги чIвалеб. 119. ХIама кьололессеги хIал кьейила. 120. ХIама тункизабурассда гIорцIен тункизабулеб. 121. ХIама хвани, варис гьойила. 122. ХIама хвани, тIом ххутIула, на хвани, щибго ххутIуларо. 123. ХIама хвани, хур хола. 124. ХIама хвей – чодуе балагь. 125. ХIама – хIамихъего, чу – чохъего. 126. ХIама чIвай бацIил гIайиб батани, бацIал ругеб бакIалде ин хIамилги гIайиб буго. 127. ХIамабагьадур камураб росу букIунареб, хIажигIиса камураб бертин букIунареб. 128. ХIамабагьадурассул гIумру къокъаб. 129. ХIамабагьадурлъиги гьабуге, гьечIеб бахIарчилъи бихьизабизеги лIугьунге. 130. ХIамабахIарчилъи гьабизе ццевеги кIанцIуге, лIутизе нахъаги чIчIоге. 131. ХIамаги бацIадиссессул, бацIги бацIадиссессул. 132. ХIамаги дирго, гьирги дирго. 133. ХIамаги къваригIун, къадруги бокьун. 134. ХIамаги хIамайила, хIамида рекIаравги хIамайила. 135. ХIамагIанаб бацI букIунареб, бицанщинаб рагIи батулареб. 136. ХIамалъун гьагIулареб, гьойлъун хIапулареб. 137. ХIамида асскIобе гIари гуребила бачIунеб, гIорода асскIобе хIамайила. 138. ХIамида жибго хIама букIин, гIин цIцIараб меххалълъ гурони, лъачIебила. 139. ХIамида къвал бан, хIама балагьарав, чода рекIун, чу балагьарав. 140. ХIамида кьабизе щвечIони, гъалдибералдагIаги кьабейила. 141. ХIамида кьили рекъолареб, чода гъалдибер рекъолареб. 142. ХIамида кIерт берцинаб (Бищун берцинаб жоялда байилан хIамихъе цIцIумур кьурабила, гьелълъги жиндирго кIартида барабила). 143. ХIамида оххцер кваназе щибила лъалеб. 144. ХIамида рагIизе гъалдибералда кьабулеб. 145. ХIамида хIеренлъи лъалареб, лълъадуе рецц рекъолареб. 146. ХIамидаги мачу ретIарал, бачидаги чарухъал ретIарал. 147. ХIамидассанила бачида мал базе лъараб. 148. ХIамие жиндирго гьагIи берцинаб, хIелкие жиндирго гIегIеди берцинаб. 149. ХIамие тIил гьечIого гIолареб, тIоххое риди гьечIого гIолареб (ХIамие – тIил, тIоххое – риди). 150. ХIамие – хIенссеркIо, чодуе – цIцIал. 151. ХIамие – чури, чоде – кIалцIи. 152. ХIамикълъи бихьарассила хIамил къимат гьабулеб. 153. ХIамил гьагIдеялълъ гьойдул бетIер унтарабила. 154. ХIамил гIайиб – хIалакълъи, гIарцул гIайиб – гьечIолъи. 155. ХIамил гIундул ххалалъаралила, алжаналълъубе билълъунарого, цIцIан рачIчI къокълъарабила, къватIибе билълъунарого, тIун. 156. ХIамил инссухъачи гьвейила. 157. ХIамил мугъалда носол балги цун. 158. ХIамил рачIчIалда кигIан букIунебилан гьикъани, цоясс абила натI букIунилан, цогиясс абила натIгун бащадаб букIунилан. 159. ХIамил рачIчIалълъги чаргъеду ккурабила. 160. ХIамил сапаралълъ чи бечелъиларо. 161. ХIамил хвел – гьвел кIалбиччанкъо. 162. ХIамилги къажарассулги херлъи-бахIарлъи лъаларебила. 163. ХIамитIасса вортулев чотIа рекIунарев. 164. ХIамитIенкел тIад чIваниги, берцинай йиго берцинай. 165. ХIамихъего хьвагIулагойила бачил бохх бекараб. 166. ХIамицца абурабила, лъалареб бакIалдеги бачун, жиб чуйилан бичейилан. 167. ХIамицца ганчIилI речIчIулел, чоцца хIурулI речIчIулел. 168. ХIамицца гIундул кIорокIун, бацI хIинкъиларо. 169. ХIамицца жиндаго кьабизе тIил, къалиги бан, босарабила; гIабдалассда кьабизе тIил, къолода ххадуб ссахIги бан, босизе кколебила. 170. ХIамицца реххарав гIорцIада бегьуларев, гIорцIада чухьарлъарав чода ярагьунарев. 171. ХIан гIадин хIанчIиледухъ тамахгоги вукIунгейила, чIваркьан векиледухъ къвакIунги вукIунгейила. 172. ХIанчIарассда гурони, ххинкIил тIагIам лъалареб. 173. ХIанчIида ракIалда мочохурила. 174. ХIанчIидаги кIолебила жинда рекъараб лълъикIлъи гьабизе. Цо чияссул рукъзабахъ цIа ккун букIанила. Цояз гIертIаз, цояз хьагаз лълъимги баччун, цIа ссвинабизе лIугьанила гIадамал. ЦIа тIадеялдасса тIаде гьалаглъулеб букIанила. Кумекалълъе дагьалги гIадамал ругеланищан ккараб хIал букIанила. ГIадамазда чIчIечIого цIадуда тIаде боржун бачIунеб, нахъе унеб цо гьитIинаб хIинчIчI бихьанила. Цояз абунила гьаниб гьелълъул бусен батилилан, цогияз абунила тIинчI батилилан. Рукъалълъул бетIергьанассда бихьанила хIинчIчIалълъ, риччарал куркьбалги тварххезарун, цIадутIе лълъел къатIраби тIинкIизарулел. ГIажаиблъарав гьесс хIинчIчIалде ахIанила - - Я, пакъир! Гьалгощинал гIадамазда ссвинабизе кIоларого бугеб цIа дур куркьбаздассан тIинкIарал къатIрабазищ ссвинабилеб? - БитIараб буго, – ян абунила хIинчIчIалълъ. – Дир куркьбаздассан тIинкIараб лълъецца гьеб ссвинаро. Дие бокьун буго гIадамаз дуе гьабулеб кIудияб лълъикIлъиялда гьоркьоб цо гьитIинабниги бутIа дирги букIине! Гьединги абун, хIинчIчI нахъеги куркьбал риччизаризе анила. 175. ХIанчIчIие бусенги – ватIан, къоркъое хIорги – ватIан. 176. ХIанчIчIил багьа – чIарил хъат. 177. ХIанчIчIил кIалдисса мугьги бахъуге, чияда бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге. 178. Гьорол хIал хIанчIчIида лъалеб, лълъадал хIал ччугIида лъалеб. 179. ХIанчIчIилаб – хIанчIие, гъадилаб – гъадие. 180. ХIанчIчIицца абурабила - лълъикIав бахIарчиясс жинда гьецIцIоги речIчIиларила, къадарасс реххараб щвезе жибги чIчIеларила. 181. ХIанчIчIиццаги чIчIезе гIаркьел берцинаб бищулебила. 182. ХIапдолареб гьойдуе чури тIолареб. 183. ХIарам гьабурассе хIучч битIуларо. 184. ХIарам, хIалал кIоченчIого хIалтIулев Аллагьассеги вокьулев. 185. ХIарамаб боцIцIи кванан, кьаралъиялдаса, хIалалаб боцIцIи кванан, хIалакълъиго лълъикI. 186. ХIарамаб боцIцIуда баркат лъолареб. 187. ХIарччида нахъа чехь цIуне, чияр рокъоб бер цIуне. 188. ХIарччил кинаб рахъалдассан кваниги – цохIого мочол ххинкIал. 189. ХIарччиниб ххинкIги цо букIунаребила. 190. ХIарччиниссаги бортун, туртидассанги хъущтIун. 191. ХIарччихъ валагьун, кванай, копохъ валагьун, велъе. 192. ХIарщуда хIетIе хъвазе теларилан лIугьарав магIаруласс хIарщулI дегIен чIчIарабила. 193. ХIарщулI тIилал кьабуни, тIираби дудегоги щолел. 194. ХIарщулIе ккун чоргарав чурун вацIцIалъула, чагъир гьекъон чоргарав чурун вацIцIалъуларо. 195. ХIарщулIе реххунилан месед чуруклъулареб. 196. ХIарщулI цIцIалги кьабуге, цIцIалкIинибе лълъимги тIоге. 197. ХIасанил чу бачиде ккарабила. 198. ХIатIал ракулI ругессул кверал гьацIцIул цIолелила. 199. ХIатIида тункун ворчIиялдасса нуцIцIида тункун ворчIи лълъикIаб. 200. ХIатIиде бахине тани, нацIцI бетIералдеги бахунебила. 201. ХIатIикь щиб бугебали малъ гIодоб чIвалалде валагье. 202. ХIебтил бугониги, дирго кунта дарайдул. 203. ХIежалде анщинавги хIажи вукIунаревила, цIцIаланщинавги дибир вахъунаревила. 204. ХIежалде унилан, хIама хIажилъиларо. 205. ХIелеко гIегIедунилан сордо рогьинаро, гIегIедичIогойилан сордо рогьинчIогоги букIинаро. 206. ХIелеко лIугьунеб тIинчI ханинибго чIчIикIдулеб. 207. ХIелкида кколебила, жиб тIассан унелълъул, тIох тIечIого киндай ххутIулебилан. 208. ХIелкил гьудул гьечIевила, гьорол тушман гьечIевила. 209. ХIелкил гIадаб гIамал, гIебу гIадаб ракI. 210. ХIеренаб мацIцI чармил ххвалчадассаги бергьунебила. 211. ХIетIе кодобе босилалде, чIчIезе бакI хIадур гьабе. 212. ХIетIе хъущтIун вортарав тирщун тIаде вахъуна, мацIцI хъущтIун вортарассда вахъине хIал кIоларо. 213. ХIехьоларессе боцIцIи кьогеги, Аллагь! 214. ХIилаялълъ балагьуге, хIалтIун балагье. 215. ХIилаялълъ бергьинги гьунар буго. 216. ХIинкъараб гьой гIемер хIапдолебила. 217. ХIинкъараб лочнохъе чан щолареб, хIинкъараб боцца хъала бахъулареб. 218. ХIинкъарав гьойдаги ватIа гьавизе лъалевила. 219. ХIинкъарав къойил хола, къвакIарав цоцIцIул хола. 220. ХIинкъарав, къурав чиясс гIамал гIемер гьабула. 221. ХIинкъарав чияссда рохьги бойилан кколебила, гъотIол гIаркьелги жинде битIизабураб туманкIилан кколебила. 222. ХIинкъаравги гьардохъанги – гьвел мурад. 223. ХIинкъарассда мал балев, къвакIарассда къвал балев. 224. ХIинкъарассе хIалхьи гьечIеб. 225. ХIинкъарассул квер ххеххаб, виххарассул хIетI ххеххаб. 226. ХIинкъарассулгун гьудуллъи гьабуге. 227. ХIинкъарассухъа билараб багьадурассда батулеб. 228. ХIинкъи гьечIеб жо кетойила, кутак бугеб жо цIцIунцIцIрайила. 229. ХIинкъи гIанкIкIие те, хIамабагьадурлъи гIабдалассе те. 230. ХIинкъи – цIцIодорлъи, цIакълъи – гьаглъи. 231. ХIинкъизе бакI гьечIо чабхъад арав васассда, анцIила щуго сон бараб чуги буго, къого сон барав живгоги вуго. 232. ХIинкъиялдалъун чи къадаралдасса ворчIуларо. 233. ХIинкъуге, хIинкъараб жо толебани, катицца гIункIкI телаан. 234. ХIинкъуларев чи вукIунарев, биунареб чаран букIунареб. 235. ХIинкъуларев чи вукIунарев, хIехьезе кколеб. 236. ХIинкъун вукIин лълъикIав чияссги хIал дагьлъун букIин лълъикIаб чоццаги лъазе толареб. 237. ХIинкъун квараб гьанадасса хIинкъичIого квараб гьуэр лълъикIаб. 238. ХIинкъун къадаралдасса рорчIуларел, Аллагьасс гурони рухI бахъулареб. 239. ХIинццаб хIамаялда тIил рагIуларо, тIогьисса рачIчIги ккун, гьод буханиги. ТIадагьаб бетIералълъ малълъ босуларо, 240. тIолго гIалам бачIун, ццебе чIчIаниги. 241. ХIинчIчI бихьунила рорженги букIунеб. 242. ХIисаб бугин, бухIун кье. – ХIичи щиб? – ЧIчIикIу. –ЧIчIикIу щиб? – ХІичи. 243. ХIобода дарай ккуни, гьебги берцин бихьулеб. 244. ХIобое чIван, гIочIоцца чIалу кквеларо, чIалуе лъун, тIилицца тIох баччиларо. 245. ХIобоцца рукъ баччула, тIаде ккарасс къо хIехьола. 246. ХIор букIаралълъуб хIари камулареб. 247. ХIотоцца гьорчо кколареб. 248. ХIотол сум букIагIаги, мутIигIлъе бетIерассде. 249. ХIуби тиризабурассда цили тиризабулеб. 250. ХIуби чIвачIонани, чIалу бекула. 251. ХIуби чIвачIони, чIалу кколареб, чIчIужу гьечIони, рукъ кколареб. 252. ХIужа гьечIеб дагIбагун диваналде вахъунге. 253. ХIули – тIавусил, тIул-ракI – борхьил. 254. ХIунссизе хIамидаги кколеб. 255. ХIунчулеб заз баккудассаго лъалеб, лIугьунев чи гьитIинго лъалев. 256. ХIур тамахалъубила хIама гебергулеб. 257. ХIурмат бокьун батани, гIемер гаргадуге, сахлъи бокьун батани, гIемер кванаге.
- ts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ГI f 1. ГIаба ретIарассе дунги инчIила, чухъа ретIарав диеги щвечIила (чухъа ретIарасс дунги ячинчIила). faba reTaraSe dungi inzila, xu]a reTaraw diyegi &wezila (xu]a reTaraS dungi yaxinzila). 2. ГIабдал берталълъе ахIани, жив анивго чIчIелилан лIугьуневила. fabdal berta:e a\ani, $iw aniwgo Zelilan /uhunewila. 3. ГIабдал бищун ццеве гIиссинлъималаздайила лъалев. fabdal bi&un Cewe fiSin;imala#dayila ;alew. 4. ГIабдал вукIаниги, цIцIодор вукIаниги, аххир цойила. fabdal wujanigi, ~odor wujanigi, a{ir coyila. 5. ГIабдал гьечIони, цIцIогьорассе боцIцIи кисса? fabdal hezoni, ~odoraSe bo~i kiSa? 6. ГIабдал гIодиларо, цIцIодор велъиларо. fabdal fodilaro, ~odor we;ilaro. 7. ГIабдал кьурдуларевила, кьурдани, чIчIоларевила (чIчIезе лъаларебила). fabdal purdularewila, purdani, Zolarewila (Ze#e ;alarebil). 8. ГIабдал кIалъалелълъул, цIцIодор вуцIцIун чIчIолев. fabdal ja;ale:ul, ~odor wu~un Zolew. 9. ГIабдал лумо гьавизе росу бахъараб меххалълъ, гьесс гьикъарабила - «Чан мали бугонидай зодоре гIунтIила?». fabdal lumo hawi#e rosu ba]arab me{a:, heS hiqarabila - «xan mali bugoniday #odore funTila?». 10. ГIабдал рокъове виччаялдасса гIакъил лъорове виччай лълъикIаб. fabdal roqowe wiXayaldaSa faqil ;orowe wiXay :ijab. 11. ГIабдал хIалтIизеги вачунге, гIабдалассда цадахъги хIалтIуге. fabdal \alTi#egi waxunge, fabdalaSda cada]gi \alTuge. 12. ГIабдаласс боцIцIи балагьула, цIцIодорасс гIакълу балагьула. fabdalaS bo~i balahula, ~odoraS faqlu balahula. 13. ГIабдаласс вецциялдасса цIцIодорасс какиго лълъикIила. fabdalaS weCiyaldaSa ~odoraS kakigo :ijila. 14. ГIабдаласс гурони гIабдалассе гIакълу кьоларебила. fabdalaS guroni fabdalaSe faqlu polarebila. 15. ГIабдаласс гурони гIунгутIаби ралагьуларел. fabdalaS guroni funguTabi ralahularel. 16. ГIабдаласс гьедун бицунебила, гIакъиласс кици тIамун бицунебила. fabdalaS hedun bicunebila, faqilaS kici Tamun bicunebila. 17. ГIабдаласс гIодобе бала, цIцIодорасс бищула. (ГIабдаласс гIодобе бараб цIцIодорасс бищула). fabdalaS fodobe bala, ~odoraS bi&ula. (fabdalaS fodobe barab ~odoraS bi&ula). 18. ГIабдаласс квараб жоялълъул бицунеб, цIцIодорасс лъараб жоялълъул бицунеб. fabdalaS kwarab $oya:ul bicuneb, ~odoraS ;arab $oya:ul bicuneb. 19. ГIабдаласс малълъулелдеги гIин тIаме, битIараб батичIони гьабичIого те. fabdalaS ma:uleldegi fin Tame, biTarab batizoni habizogo te. 20. ГIабдаласс нилIее лъабго гIакълу кьуни, цоябниги битIараб батизе бегьулеб. fabdalaS ni/eye ;abgo faqlu puni, coyabnigi biTarab bati#e behuleb. 21. ГIабдалассда бицараб жо – базаралда ахIараб гIакIа. fabdalaSda bicarab $o - ba#aralda a\arab faja. 22. ГIабдалассда гуребила гIайиб букIунеб, гIабдал валъаргъарассдайила. fabdalaSda gurebila fayib bujuneb, fabdal wa;arvaraSdayila. 23. ГIабдалассда гIайиб чIчIоларебила. fabdalaSda fayib Zolarebila. 24. ГIабдалассда данде мунги гIабдаллъун чIчIайила. fabdalaSda dande mungi fabdal;un Zayila. 25. ГIабдалассда кигIан малълъараниги, гьесс жиндирабго гурони гьабулареб. fabdalaSda kifan ma:aranigi, heS $indirabgo guroni habulareb. 26. ГIабдалассда малълъараб жо – гIодобе бортараб чIор. fabdalaSda ma:arab $o - fodobe bortarab zor. 27. ГIабдалассда малълъарани мунго рихунев. fabdalaSda ma:arani mungo ri[unew. 28. ГIабдалассда нич гьечIеб, цIцIогьорассда яхI гьечIеб. fabdalaSda nix hezeb, ~ohoraSda ya\ hezeb. 29. ГIабдалассе бертин къойил букIунеб. fabdalaSe bertin qoyil bujuneb. 30. ГIабдалассе гIабдал вокьулев, гIакъилассе гIакъил вокьулев. fabdalaSe fabdal wopulew, faqilaSe faqil wopulew. 31. ГIабдалассе гIакъил вокьуларев, меххтарассе вигьарав вокьуларев. fabdalaSe faqil wopularew, me{taraSe wiharaw wopularew. 32. ГIабдалассе дару – данде кIалъачIого тей. fabdalaSe daru - dande ja;azogo tey. 33. ГIабдалассе гIадлу гьечIеб. fabdalaSe fadlu hezeb. 34. ГIабдалассул гIеч гIадин гьоркьов инеги чIчIоге. fabdalaSul fex fadin horpow inegi Zoge. 35. ГIабдалассул – зар, гIакъилассул – хIал. fabdalaSul - #ar, faqilaSul - \al. 36. ГIабдалассул кочIохъ гIенеккиялдасса цIцIодорассул семиялълъухъ гIенеккиго лълъикIила. fabdalaSul kozo] feneKiyaldaSa ~odoraSul semiya:u] feneKizogo :ijila. 37. ГIабдалассул кумекалдасса кумекчи гьечIого лълъикI. fabdalaSul kumekaldaSa kumekxi hezogo :ij. 38. ГIабдалассул кIалалда гIакIа гьечIеб. fabdalaSul jalalda faja hezeb. 39. ГIабдалассул – мацIцIалда, цIцIодорассул – рекIеда. fabdalaSul - ma~alda, ~odoraSul - rejeda. 40. ГIабдалассул мацIцIалълъги хIикматаб жо бицуна, щиб гьессул рагIийилан, гIин тIамичIого тоге. fabdalaSul ma~a:gi \ikmatab $o bicuna, &ib heSul rafiyilan, fin Tamizogo toge. 41. ГIабдалассул ракI – мацIцIалдайила, цIцIодорассул мацIцI – ракIалдайила. fabdalaSul raj - ma~aldayila, ~odoraSul ma~ - rajaldayila. 42. ГIабдалассул рекIелгъей умумузул асс-къоялде букIуна, гIакъилассул рекIелгъей лълъикIабщиналде букIуна. fabdalaSul rejelvey umumu#ul aS-qoyalde bujuna, faqilaSul rejelvey :ijab&inalde bujuna. 43. ГIабдалассулги гIакъилассулги аххир цойила (ГIабдал вегулебги – хоб, гIакъил вукъулебги – хоб). fabdalaSulgi faqilaSulgi a{ir coyila (fabdal wegulebgi - [ob, faqil wuqulebgi - [ob). 44. ГIабдалгун кваназегIан, цIцIодоргун вакъиго лълъикI. fabdalgun kwana#efan, ~odorgun waqigo :ij. 45. ГIабдалгун къаццандулев гьессдассаги гIантавила. fabdalgun qaCandulew heSdaSagi gantawila. 46. ГIабдалассулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун маххссараги гьабуге. fabdalaSulgun hudul;i habuge, hoydulgun ma{Saragi habuge. 47. ГIабдалги ахIмакъги рекъон чIчIоларо. fabdalgi a\maqgi reqon Zolaro. 48. ГIабдалги гуккуге, гIабдаласс гуккизеги чIчIоге. fabdalgi guKuge, fabdalaS guKi#egi Zoge. 49. ГIабдалги гIакъилги киназдаго лъала. fabdalgi faqilgi kina#dago ;ala. 50. ГIабдалгун къаццандуге, мунго къунгутIизе. fabdalgun qaCanduge, mungo qunguTi#e. 51. ГIабул чехъечIого, хоноги кунаро. fabul xe[ezogo, [onogi kunaro. 52. ГIагарав чияссул гьан кваниги, ракьа гIодобе реххизе бегьулареб. fagaraw xiyaSul han kwanigi, rapa fodobe re{i#e behulareb. 53. ГIагарлъи лъала къо ккедал, гьудул лъала къваригIел ккедал. fagar;i ;ala qo Kedal, hudul ;ala qwarifel Kedal. 54. ГIагарлъи лъаларессе алжан гьечIебила. fagar;i ;alareSe al$an hezebila. 55. ГIагарлъи цIуне чIаго рукIаго, хвараб меххалълъ «гIагарал чагIи» чанги ратулел. fagar;i `une zago rujago, [warab me{a: «fagaral xafi» xangi ratulel. 56. ГIагарлъиялълъул гьуинлъи гьоркьобакI цIцIикIкIанагIан цIцIикIкIунебила. fagar;iya:ul huin;i horpobaj ~iJanafan ~iJunebila. 57. ГIада-гIадамазе чваххун цIцIад байдал, дие горо бараб дуниял! fada-fadama#e xwa{un ~ad baydal, diye goro barab duniyal! 58. ГIадада бицараб рагIи – гIадада реххараб чIор. fadada bicarab rafi - fadada re{arab zor. 59. ГIадалаб бетIералълъ хIатIазе гIазаб кьолебила. fadalab beTera: \aTa#e fa#ab polebila. 60. ГIадалаб гъурщидасса цIцIодораб нус лълъикIаб. fadalab vur&idaSa ~odorab nus :ijab. 61. ГIадалаб заманалда гIакъилзабигицин гIадаллъулелила. fadalab #amanalda faqil#abigicin fadal;ulelila. 62. ГIадалав вехь хвани боцIцIуе рахIат, гIадалав ххан хвани ххалкъалълъе рахIат. fadalaw we% [wani bo~uye ra\at, fadalaw {an [wani {alqa:e ra\at. 63. ГIадалав гьудулассдасса гIакъилав тушманго лълъикIила. fadalaw hudulaSdaSa faqilaw tu^mango :ijila. Циги чиги цоцазе цIакъ рокьулел рукIун руго. Цицца чи ссундассаго цIунулев вукIун вуго. Гьессда асскIобе чIагояб жо къазе биччалеб букIун гьечIо. Цо нухалда чи кьижун вукIун вуго, ци жиндирго гIадаталда рекъон хъаравуллъуда букIун буго. ТIутI рещтIун буго чияссул надалда. Ццин бахъараб цицца тIотIода кьабураб квачIалълъ тIутIги хун буго, чиги хун вуго. cigi xigi coca#e `aq ropulel rujun rugo. ciCa xi SundaSago `unulew wujun wugo. heSda aSjobe zagoyab $o qa#e biXaleb bujun hezo. co nu[alda xi pi$un wujun wugo, ci $indirgo fadatalda reqon ]arawul;uda bujun bugo. TuT re&Tun bugo xiyaSul nadalda. Cin ba]arab ciCa ToToda paburab kwaza: TuTgi [un bugo, xigi [un wugo. 64. ГIадалав гIагарав чияссдасса цIцIодорав мадугьал анцIцIцIул лълъикIав. fadalaw fagaraw xiyaSdaSa ~odoraw maduhal an`~ul :ijaw. 65. ГIадалав ххан – къвачIинибе бараб цIулакьо. fadalaw {an - qwazinibe barab `ulapo. 66. ГIадалав чи ЯхIия гудрадаго гIанкIкI тарав. fadalaw xi ya\ya gudradago fanJ taraw. 67. ГIадалай бикаялдасса гIакъилай гъарабашго лълъикI. fadalay bikayaldaSa faqilay varaba^go :ij. 68. ГIадалнахги ххунчIрулги цоцалълъ журараб меххалълъ гIолохъанчи вукIунарев (кколарев). fadalna[gi {unzrulgi coca: $urarab me{a: folo]anxi wujunarew (Kolarew). 69. ГIадамаз гьагу бачани дуццаги гьагу баче, гIадамаз цIцIекIу бачани, дуццаги цIцIекIу баче. fadama# hagu baxani duCagi hagu baxe, fadama# ~eju baxani duCagi ~eju baxe. 70. ГIадамаз квешав чи вугилан абиялдасса кватIичIого хабалIе инго лълъикI. fadama# kwe^aw xi wugilan abiyaldaSa kwaTizogo [aba/e ingo :ij. 71. ГIадамаз къимат гьабулареб кIиго жойила дунялалда бугеб - сахлъиги эркенаб заманги. fadama# qimat habulareb jigo $oyila dunyalalda bugeb - sa[;igi erkenab #amangi. 72. ГIадамаз малълъухъе гьабуге, гьез гьабухъе гьабе. fadama# ma:u]e habuge, he# habu]e habe. 73. ГIадамаз ракь кваназабула – ракьалълъ гIадамал кваназарула. fadama# rap kwana#abula - rapa: fadamal kwana#arula. 74. ГIадамазда гъорлI вукIине лъайги кIудияб гIелму буго. fadama#da vor/ wujine ;aygi judiyab felmu bugo. 75. ГIадамазда гьоркьов - лълъикIав чи, живго ххутIидал – ххиянатчи. fadama#da horpow - :ijaw xi, $iwgo {uTidal - {iyanatxi. 76. ГIадамазда гьоркьой хханассул бика гIадай, балъда нахъа хъартил тIинчI гIадай. fadama#da horpoy {anaSul bika faday, ba;da na]a ]artil Tinz faday. 77. ГIадамазда чIалгIарав, Аллагьассда рихарав (ГIиссиназда чIалгIарав, чIахIиязда рихарав). fadama#da zalfaraw, allahaSda ri[araw (fiSina#da zalfaraw, za\iya#da ri[araw). 78. ГIадамаздасса ццевеги кIанцIуге, нахъаги ххутIуге. fadama#daSa Cewegi jan`uge, na]agi {uTuge. 79. ГIадамазе вокьарав Аллагьассеги вокьулев. fadama#e woparaw allahaSegi wopulew. 80. ГIадамазе баркала кьоларесс Аллагьассеги кьоларо. fadama#e barkala polareS allahaSegi polaro. 81. ГIадамазе – гьан, гьабзазе – рукьби, мискинассе – ратIа, бечедассе – бохх. fadama#e - han, hab#a#e - rupbi, miskinaSe - raTa, bexedaSe - bo{. 82. ГIадамазе гьойлъарав, гьабзазе ракьалъарав. fadama#e hoy;araw, hab#a#e rapa;araw. 83. ГIадамазе рикъзи кьеги, Аллагь, дие чорххое сахлъи кьеги. fadama#e riq#i pegi, allah, diye xor{oye sa[;i pegi. 84. ГIадамазул абундачаз азбаралълъул гъапу къани, къватIир ххутIулелила. fadama#ul abundaxa# a#bara:ul va_u qani, qwaTir {uTulelila. 85. ГIадамазул гIабдал – чанахъан, чуязул гIабдал – юргъачу. fadama#ul fabdal - xana]an, xuya#ul fabdal - yurvaxu. 86. ГIадамазул кIал бухьине кIолареб. fadama#ul jal bu%ine jolareb. 87. ГIадамазул хIурмат гьабунгутIи дурго хIурмат гьабунгутIи ккола. fadama#ul \urmat habunguTi durgo \urmat habunguTi Kola. 88. ГIадамазухъего иш гьабизе лIугьунге. fadama#u]ego i^ habi#e /uhunge. 89. ГIадамал ахIуд унелълъул - чехь унтарав, бахIарзал кьалде щолелълъул - мугъ унтарав. fadamal a\ud une:ul - xe% untaraw, ba\ar#al palde &ole:ul - muv untaraw. 90. ГIадамал бакъвараб бакIалдассан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа, хIарщулIан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа. fadamal baqwarab bajaldaSan ri:ani, mungi heniSan wi:a, \ar&u/an ri:ani, mungi heniSan wi:a. 91. ГIадамал берталълъ кьурдулел, цIцIогьор нуцIцIида кIулал ран ратидал кьурдулев. fadamal berta: purdulel, ~ohor nu~ida julal ran ratidal purdulew. 92. ГIадамал гурхIизеян гIодарай, давла щвезеян щокълъарай. fadamal gur\i#eyan fodaray, dawla &we#eyan &oq;aray. 93. ГIадамал гIемералълъуб чехь къай, чи гIемералълъуб бер къай. fadamal femera:ub xe% qay, xi femera:ub ber qay. 94. ГIадамал какуге, мунго веццуге. fadamal kakuge, mungo weCuge. 95. ГIадамал киналго лълъикIал рукIинаан, «кIиго рагIи» лълъиццаниги бицунаребани. fadamal kinalgo :ijal rujinaan, «jigo rafi» :iCanigi bicunarebani. 96. ГIадамал къулухъе къула, гIадамал рорххухъе ворхха. fadamal qulu]e qula, fadamal ror{u]e wor{a. 97. ГIадамал кьурдахъе кьурдизеги лъаларев, кьурдичIого чIчIезеги лъаларев. fadamal purda]e purdi#egi ;alarew, purdizogo Ze#egi ;alarew. 98. ГIадамал лъанагIан гьаби рокьулел рукIун руго. fadamal ;anafan habi ropulel rujun rugo. 99. ГIадамал ритIизаризе лIугьарав тIекъав чи – рагIад битIулареб тIил. fadamal riTi#ari#e /uharaw Teqaw xi - rafad biTulareb Til. 100. ГIадамал рихьизе – берал, нилIго рихьизе – матIу. fadamal ri%i#e - beral, ni/go ri%i#e - maTu. 101. ГIадамал хваралълъув хва, гIадамал рахъаралълъув вахъа. fadamal [wara:uw [wa, fadamal ra]ara:uw wa]a. 102. ГIадамал хваралълъув хвезеги вас вукIин талихI. fadamal [wara:uw [we#egi was wujin tali\. 103. ГIадамал хола, бахIарчи даим чIаго вукIуна. fadamal [ola, ba\arxi daim zago wujuna. 104. ГIадамалгун кьал ахIи ахIмакъассул иш буго. fadamalgun pal a\i a\maqaSul i^ bugo. 105. ГIадамалълъ вукIине лъаларессе дуниялги къваридаб, бетIербахъиги мукъссанаб. fadama: wujine ;alareSe duniyalgi qwaridab, beTerba]igi muqSanab. 106. ГIадамалI хва, гIадамалI вахъа (болI хва, болI вахъа). fadama/ [wa, fadama/ wa]a (bo/ [wa, bo/ wa]a). 107. ГIадамассдасса – боцIцIи, боцIцIудасса – цIарагI. fadamaSdaSa - bo~i, bo~udaSa - `araf. Кици буго гьадинаб божиялда тIад гIуцIцIараб, тIаде рачIунел балагьаздасса бетIергьаби цIунизе холебила хIайван. Гьединалго балагьаздасса хIайванал цIунизе бекулебила цIарагI. kici bugo hadinab bo$iyalda Tad fu~arab, Tade razunel balaha#daSa beTerhabi `ini#e [olebila \aywan. hedinalgo balaha#daSa \aywanal `uni#e bekulebila `araf. 108. ГIадамассе гIаданлъун вукIа, гьойда данде бацIлъун вукIа. fadamaSe fadan;un wuja, hoyda dande ba`;un wuja. 109. ГIадамассе къимат хIалтIи бихьун кье, хIайваналълъе къимат пайда бихьун кье. fadamaSe qimat \alTi bi%un pe, \aywana:e qimat _ayda bi%un pe. 110. ГIадамассе рецц – черххалда бахине нах. fadamaSe reC - xer{alda ba[ine na[. 111. ГIадамассул бищун кIудияб гIадаллъи – гIадамал жиндасса гIадалал ругилан ккей. fadamaSul bi&un judiyab fadal;i - fadamal $indaSa fadalal rugilan Key. 112. ГIадамассул квешлъи – гIамал кIодолъи, гIакдал квешлъи – рахь биччангутIи. fadamaSul kwe^;i - famal jodo;i, fakdal kwe^;i - ra% biXanguTi. 113. ГIадамассул ракI дуниял рагIалда, гIажалалълъул мугьру мугъалда нахъа. fadamaSul raj duniyal rafalda, fa$ala:ul muhru muvalda na]a. 114. ГIадамассул хIал кунеб, хIайваналълъул гьан кунеб. fadamaSul \al kuneb, \aywana:ul han kuneb. Кици буго къокъаб, тIассан пасихIаб букIиналда цадахъ жаниссан магIнаги гъваридаб. Абулеб буго, хIайван хьихьиялдассан асслияб мурад гьанги нахги бугеб гIадин, гIадан тIасса вищизе ккани, асслияб жо – хIал лълъикIлъи, тIабигIат лълъикIав вукIин бугилан. kici bugo qoqab, TaSan _asi\ab bujinalda cada] $aniSan mafnagi vwaridab. abuleb bugo \aywan %i%iyaldaSan aSliyab murad hangi na[gi bugeb fadin, fadan TaSa wi&i#e Kani aSliyab $o - \al :ij;i, Tabifat :ijaw wujin bugilan. 115. ГIадамассул чорххое гIелму – гIатIгояб гъотIое регьел. fadamaSul xor{oye felmu - faTgoyab voToye rehel. 116. ГIадамассулIан гуребила канлъи бихьулеб, рагIулIанила. fadamaSu/an gurebila kan;i bi%uleb, rafu/anila. 117. ГIадан адабалълъила берцин гьавулев. fadan adaba:ila bercin hawulew. 118. ГIадан басра гьави мунгоги басра гьави ккола. fadan basra hawi mungogi basra hawi Kola. 119. ГIадан басра гьавурассда басрияб къо бихьула. fadan basra hawuraSda basriyab qo bi%ula. 120. ГIадан божулареб гIумруялдасса цIунаги. fadan bo$ulareb fumruyaldaSa `unagi. 121. ГIадан ватани гIадамалълъ вукIа, гурев ватани хIайваналълъ вукIа. fadan watani fadama: wuja, gurew watani \aywana: wuja. 122. ГIадан вижулевила, гIакълу бачIунебила. fadan wi$ulewila, faqlu bazunebila. 123. ГIадан вихьун чучуге, чи вихьун рагIи бицунге. fadan wi%un xuxuge, xi wi%un rafi bicunge. 124. ГIадан вукIуневила богIолI гьоло гIадавги гьалилI сусур гIадавги. fadan wujunewila bofo/ holo fadawgi hali/ susur fadawgi. 125. ГIадан гогь гьавулебги – боцIцIи, пашман гьавулебги – боцIцIи. fadan goh hawulebgi - bo~i, _a^man hawulebgi - bo~i. 126. ГIадан гурев чияссда жо малълъи – лълъеда бикIараб накъищ. fadan gurew xiyaSda $o ma:i - :eda bujarab naqi&. 127. ГIадан гIадамассде кколевила, мегIер мегIералде кколаребила. fadan fadamaSde Kolewila, mefer meferalde Kolarebila. 128. ГIадан гIадамассе – матIу. fadan fadamaSe - maTu. 129. ГIадан гIакълуялълъ берцин гьавула, ретIел букъиялълъ берцин гьабула. fadan faqluya: bercin hawula, reTel buqiya: bercin habula. 130. ГIадан – гIатIгояб жо. fadan - faTgoyab $o. 131. ГIадан гIодов ватуларев, вичун восизе щоларев. fadan fodow watularew, wixun wosi#e &olarew. 132. ГIадан гIорцIцIидал гIергIедулевила, хIайван бакъидал гIергIедулебила. fadan for~idal ferfedulewila, \aywan baqidal ferfedulebila. 133. ГIадан квегъе берцинаб рагIиялълъ, бугъа квегъе биццатаб тIилалълъ. fadan kweve bercinab rafiya:, buva kweve biCatab Tila:. 134. ГIадан кколеб жо – бугIа, гIадан чIвалеб жо – чIагIа. fadan Koleb $o - bufa, fadan zwaleb $o - zafa. 135. ГIадан кIиго нухалълъила загIипав вукIунев, вижулагоги холагоги. fadan jigo nu[a:ila #afi_aw wujunew, wi$ulagogi [olagogi. 136. ГIадан рагIуцца реххулев, хIайван чохьоцца реххулеб. fadan rafuCa re{ulew, \aywan xo%oCa re{uleb. 137. ГIадан ракьулIе уна, хIайван хьагинибе уна, лълъикIаб иш нахъе ххутIула. fadan rapu/e una, \aywan %aginibe una, :ijab i^ na]e {uTula. 138. ГIадан рекIинчIеб чуги, чи кIалъачIей ясги рукIунарел. fadan rejinzeb xugi, xi ja;azey yasgi rujunarel. 139. ГIадан рикIкIун – хIал, хIайван рикIкIун – лIар. fadan riJun - \al, \aywan riJun - /ar. 140. ГIадан ссипат-ссураталълъ гуревила берцин гьавулев, захIматалълъила. fadan Si_at-Surata: gurewila bercin hawulew, #a\mata:ila. 141. ГIадан хола, гIаданлъи нахъе ххутIула, хIама хола, тIом гурони ххутIуларо. fadan [ola, fadan;i na]e {uTula, \ama [ola, Tom guroni {uTularo. 142. ГIадан хIал бихьун вецце, хIайван гьан бихьун бецце. fadan \al bi%un weCe, \aywan han bi%un beCe. 143. ГIадан чIвалеб жо – чIухIи. fadan zwaleb $o - zu\i. 144. ГIадан щола ракIалълъ къотIараб бакIалде. fadan &ola raja: qoTarab bajalde. 145. ГIаданилан гIадамалълъ гурев, хIайванилан хIайваналълъ гурев. fadanilan fadama: gurew, \aywanilan \aywana: gurew. 146. ГIаданлъи гьабизе кватIун букIунареб. fadan;i habi#e kwaTun bujunareb. 147. ГIаданлъи гьечIеб черхх – чилъи гьечIеб ракI. fadan;i hezeb xer{ - xi;i hezeb raj. 148. ГIаданлъи гьечIелълъуб гьудуллъи чIчIолареб. fadan;i heze:ub hudul;i Zolareb. 149. ГIаданлъиялълъулги цIезе бегьулебила таргьа. fadan;iya:ulgi `e#e behulebila tarha. 150. Чачаналде гьирихъ ун рукIанила гIандал. xaxanalde hiri] un rujanila fandal. 151. ТIад руссун рачIунаго, цо росулI гьезда кверкьаби ратанила. Цадахъ рукIаразда цоясс абунила - «Гьаниб хвел ккун бихьула. РачIа нилIецца, гьагъазда зигараги бан, гIаданлъи гьабизин». Tad ruSun razunago, co rosu/ he#da kwerbaqi ratanila. cada] rujara#da coyaS abunila - «hanib [wel Kun bi%ula. raza ni/eCa hava#da #igaragi ban, fadan;i habi#in». 152. ГIаданлъиялълъул цIун буго! ГIаданлъиялълъул! – ан абунила гьесс гьалмагъзабазда… fadan;iya:ul `un bugo! fadan;iya:ul! - an abunila heS halmav#aba#da... 153. ГIадат бугила, бетIергьанчиясс бачунеб хIама гIадин, бачухъе билълъунеб жо (Гьабухъе букIунеб жойила гIадат). fadat bugila beTerhanxiyaS baxuneb \ama fadin baxu]e bi:uneb $o (habu]e bujuneb $oyila fadat). 154. ГIадлу – алжаналълъул кIул. fadlu - al$ana:ul jul. 155. ГIадлу – багIараб месед. fadlu - bafarab mesed. 156. ГIадлу гьечIеб рокъоб рекъел букIунареб. fadlu hezeb roqob reqel bujunareb. 157. ГIадлу гьечIеб росулI гIакIа гIемераб ахIула. fadlu hezeb rosu/ faka femerab a\ula. 158. ГIадлу гьечIев хIаким – рехъен бихьуларев вехь. fadlu hezew \akim - re]en bi%ularew we%. 159. ГIадлу гьечIев цIцIалдохъанассул цIцIар гIемер ахIизе ккола. fadlu hezew ~aldo]anaSul ~ar femer a\i#e Kola. 160. ГIадлу цIцIикIкIаралълъуб цIцIогь дагьаб. fadlu ~iJara:ub ~oh dahab. 161. ГIадлуялълъулI гIажал гьечIеб, вуххиялълъул ххайир гьечIеб. fadluya:u/ fa$al hezeb, wu{iya:ul {ayir hezeb. 162. ГIажал лъала ганчIида. fa$al ;ala ganzida. МагIарулазул гIадат буго, жал мурадалде щолищан бихьизе, «бичч-бакъ» реххулеб. Алмасил МухIумиццаги реххун буго «бичч-бакъ», чанцIцIул рехханиги, гьессул анищалда рекъон ккун гьечIо эххеде реххараб гамачI. Цинги Алмасиласс гамачI, гьадал рагIабиги абун, хьуризабун буго. mafarula#ul fadat bugo, $al muradalde &oli&an bi%i#e, «biX-baq» re{uleb. almasil mu\umiCagi re{un bugo «biX-baq», xan~ulni re{anigi, heSul ani&alda reqon Kun hezo e{ede re{arab gamaz. cingi almasilaS gamaz, hadal rafabi abun, %uri#abun bugo. 163. ГIажалалда гъураб меххалълъ гIункIкIал кутулгун расандулел. fa$alalda vurab me{a: funJal kutulgun rasandulel. 164. ГIажалалде гъейгун, болъон гохIде бахунебила. fa$alalde veygun bo;on go\de ba[unebila. 165. ГIажалан абурассда унтиян абулеб, унтиян абурассда толоян абулеб. fa$alan aburaSda untiyan abuleb, untiyan aburaSda toloyan abuleb. 166. ГIажамиясс къуръан гIадин гьабила, къулгьу! – ян абурабила гIарабалълъ бечIчIизе букIунареб гIакдада. fa$amiyaS qur'an fadin habila, qulhu! - yan aburabila faraba: beZi#e bujunareb fakdada. 167. ГIазаб чIамичIого, мурадалде щоларел. fa#ab zamizogo muradalde &olarel. 168. ГIаздатIаги лъалкI толарев. fa#daTagi ;alj tolarew. 169. ГIазукь букIаниги дерец тIегь ккола, тIалтIа бижаниги хъутур чIахI ккола. fa#up bujanigi derec Teh Kola, TalTa bi$anigi ]utur za\ Kola. 170. ГIазулI вачIунге, гьоролI вачIаян абулебила цIцIогьорасс гьалмагъассда. fa#up wazunge, horo/ wazayan abulebila ~ohoraS halmavaSda. 171. ГIазулIги хIур букIунеб. fa#u/gi \ur bujuneb. 172. ГIайиб бадибе гьаби бадибе рецц гьабиялдасса нусцIцIул лълъикIаб. fayib badibe habi badibe reC habiyaldaSa nus~ul :ijab. 173. ГIайиб буго вокьуларев чияссда букIунеб жо. fayib bugo wopularew xiyaSda bujuneb $o. 174. ГIайиб буго къурассда букIунеб жо. fayib bugo quraSda bujuneb $o. 175. ГIайиб гьечIев гьудул ватуларев, багьана гьечIей лълъади йикIунарей. fayib hezew hudul watularew, bahana hezey :adi yijunarey. 176. ГIайиб гьечIессе кьураб нагIана дудего буссунебила. fayib hezeSe purab nafana dudego buSunebila. 177. ГIайиб ГIумарида – хъапасал дида. fayib fumarida - ]a_asal dida. 178. ГIайиб камурав чи вукIунарев, цо рахъ камичIеб хIалтIи букIунареб. fayib kamuraw xi wujunarew, co ra] kamizeb \alTi bujunareb. 179. ГIайиб кколареб черххги букIунареб, гIазу балареб мегIерги букIунареб. fayib Kolareb xer{gi bujunareb, fa#u balareb mefergi bujunareb. 180. ГIайиб кколарев чи вукIунарев, гIамал гьечIеб черхх букIунареб. fayib Kolarew xi wujunarew, famal hezeb xer{ bujunareb. 181. ГIайиб кколарей чIчIужу ялагьулев, чIчIужу гьечIого ххутIулев. fayib Kolarey Zu$u yalahulew, Zu$u hezogo {uTulew. 182. ГIайиб кIалалда кколеб, зар бетIералда щолеб. fayib jalalda Koleb, #ar beTeralda &oleb. 183. ГIайиб – къватIиб, дун – рокъов. fayib - qwaTib, dun - roqow. 184. ГIайиб лълъилго кколебила, мунагь ккезе вукIунгейила. fayib :ilgo Kolebila, munah Ke#e wujungeyila. 185. ГIайибал рорцани меххелалда жаниб 200 россассда 200 чIчIужуялда кколебила. РорцинчIого тани, цониги кколаребила. fayibal rorcani me{elalda $anib 200 roSaSda 200 Zu$uyalda Kolebila. rorcinzogo tani, conigi Kolarebila. 186. ГIайибалда къвал барав, мунагьалда кьан барав. fayibalda qwal baraw, munahalda pan baraw. 187. ГIайибалдасса къадарабги гIила букIунебила. fayibaldaSa qadarabgi fila bujunebila. 188. ГIайибалдасса нечоларев, мунагьалдасса хIинкъуларев. fayibaldaSa nexolarew, munahaldaSa \inqularew. 189. ГIайибалълъ чехь бихъулареб носоцца гурони. fayiba: xe% bi]ulareb nosoCa guroni. 190. ГIайибав тамихIалълъукьа хIинкъулевила, гIайиб гьечIев къисматалълъукьа хIинкъулевила. fayibaw tami\a:upa \inqulewila, fayib hezew qismata:upa \inqulewila. 191. ГIака балагье рахь-нахалълъе лълъикIаб, чIчIужу ялагье гIамал-ххассият лълъикIай. faka balahe ra%-na[a:e :ijab, Zu$u yalahe famal-{aSiyat :ijay. 192. ГIака бечIчIизе лъаларелълъ азбар (лолон) гьетIараб бугилан абурабила. faka beZi#e ;alare: a#bar (lolon) heTarab bugilan aburabila. 193. ГIака бечIчIулелилан хIама бечIчIулел ратугеги. faka beZulelilan \ama beZulel ratugegi. 194. ГIака бичаравги, туххум таравги чи бечелъуларо. faka bixarawgi, tu{um tarawgi xi bexe;ularo. 195. ГIака биче бечIчIизе букIунареб, ригьин биххе дургун хIал рекъолареб. faka bixe beZi#e bujunareb, rihin bi{e durgun \al reqolareb. 196. ГIака бокьула нахулаб, гIадан вокьула гIамал лълъикIав. faka bopula na[ulab, fadan wopula famal :ijaw. 197. ГIака босейила рахьдалаб, чIчIужу ячейила гIамал берцинай. faka boseyila ra%dalab, Zu$u yaxeyila famal bercinay. 198. ГIака босилалде бокь гьабе, чIчIужу ячиналде рукъ гьабе. faka bosilalde bop habe, Zu$u yaxinalde ruq habe. 199. ГIака гьечIеб къайи – гIи гьечIеб ручун. faka hezeb qayi - fi hezeb ruxun. 200. ГIака какун нах кварай, росс какун рукъ кварай. faka kakun na[ kwaray, roS kakun ruq kwaray. 201. ГIака кьанагъдичIони кьандиб жо бугъилги багъарулареб. faka panavdizoni pandib $o buvilgi bavarulareb. 202. ГIака лъала лъабцIцIул къинлъидал, вас лъала эмен херлъидал. faka ;ala ;ab~ul qin;idal, was ;ala emen [er;idal. 203. ГIака ххаххаралълъул – бече хIалакъаб, кето кьариялълъул – хIама хIалакъаб. faka {a{ara:ul - bexe \alaqab, keto pariya:ul - \ama \alaqab. 204. ГIака чIчIегIераб бугониги, рахь хъахIаб букIуна. faka Zeferab bugonigi, ra% ]a\ab bujuna. 205. ГIакайилан ккун хIама бечIчIарай. fakayilan Kun \ama beZaray. 206. ГIакарумагIарда гIодоб чIчIараб оцгIанаб гIазу бугони, Ххунзахъ рекьи хъукьлъулареб. fakarumafarda fodob Zarab ocfanab fa#u bugoni, {un#a] repi ]up;ulareb. 207. ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран. fakdalgun ni/er bugeb $o - daran. 208. ГIакдацца гуребила рахь кьолеб, чуруццайила. fakdaCa gurebila ra% poleb, xuruCayila. 209. ГIакдацца рачIчI хьвагIичIони бугъа ххадуб унареб. fakdaCa raZ %wafizoni buva {adub unareb. 210. ГIакъил гIадада кIалъаларев. faqil fadada ja;alarew. 211. ГIакъил гIодове виччан кIалъала, гIабдал ахIдола. faqil fodowe wiXan ja;ala, fabdal a\dola. 212. ГIакъил кици тIамун кIалъала, гIабдаласс гьедун бицуна. faqil kici Tamun ja;ala, fabdalaS hedun bicuna. 213. ГIакъил къадруялде вахани мегIергIан кьуруларев, гIабдал даражаялде вахани хIотол сум гIадин гьетIарулев. faqil qadruyalde wa[ani meferfan purularew, fabdal dara$ayalde wa[ani \otol sum fadin heTarulew. 214. ГIакъил мекъи ккани, гIемерал мекъи ккола. faqil meqi Kani, femeral meqi Kola. 215. ГIакъил тIоццеве гIакъилассда лъала, гIабдал тIоццеве гIиссинлъималазда лъала. faqil ToCewe faqilaSda ;ala, fabdal ToCewe fiSin;imala#da ;ala. 216. ГIакъилчи хвани нахъе лълъикIаб цIцIар ххутIула, гIалимчи хвани лълъикIаб асар ххутIула. faqilxi [wani na]e :ijab ~ar {uTula, falimxi [wani :ijab asar {uTula. 217. ГIакъилаб бетIералълъе тIил къваригIунареб. faqilab beTera:e Til qwarifunareb. 218. ГIакъилаб гьой гIадада хIапдолареб, гIакъилав чи гIадада чвархъоларев. faqilab hoy fadada \a_dolareb, faqilaw xi fadada xwar]olarew. 219. ГIакъилаб жо бицине ххалатаб калам къваригIунаро. faqilab $o bicine {alatab kalam qwarifunaro. 220. ГIакъилав мискинчи къого бечедассдасса лълъикIав. faqilaw miskinxi qogo bexedaSdaSa :ijaw. 221. ГIакъилав чияссул гIантал лъималги рукIунел, гIантав чияссул гIакъилалги рукIунел. faqilaw xiyaSul fantal ;imalgi rujunel, fantaw xiyaSul faqilalgi rujunel. 222. ГIакъилавлъун вукIине квалквал гьабула гIакъилавлъун вукIине жигар бахъиялълъ. faqilaw;un wujine kwalkwal habula faqilaw;un wujine $igar ba]iya:. 223. ГIакъилал руцIцIун чIчIарабги заман бачIунебила. faqilal ru~un Zarabgi #aman bazunebila. 224. ГIакъилал эбел-инссулги рукIине бегьулелила гьагал лъимал. faqilal ebel-inSulgi rujine behulelila hagal ;imal. 225. ГIакъиласс бихьараб-рагIараб бицуна, гIабдаласс чохьол бицуна. faqilaS bi%arab-rafarab bicuna, fabdalaS xo%ol bicuna. 226. ГIакъиласс гIакъилай чIчIужу ялагьула, гIабдаласс гьумер берцинай ялагьула. faqilaS faqilay Zu$u yalahula, fabdalaS humer bercinay yalahula. 227. ГIакъиласс магIардаги ах гьабулеб, гIабдаласс гIанкIудул ханазул тIамуниги лал бокъинабулареб. faqilaS mafardagi a[ habuleb, fabdalaS fanjudul [ana#ul Tamunigi lal boqinabulareb. 228. ГIакъиласс ургъун бицуна, гIабдаласс кьвагьун биччала. faqilaS urvun bicuna, fabdalaS pwahun biXala. 229. ГIакъиласс цо чIчIужу ячуней, гIабдаласс чан щваниги ячуней. faqilaS co Zu$u yaxuney, fabdalaS xan &wanigi yaxuney. 230. ГIакъилассда малълъе, гIабдал гурони вуххуге. faqilaSda ma:e, fabdal guroni wu{uge. 231. ГIакъилассдасса ватIалъуге, гIабдалассда нахъвилълъунге. faqilaSdaSa waTa;uge, fabdalaSda na]wi:unge. 232. ГIакъилассдассан гIакълу щола, гIабдалассдассан щибго щоларо. faqilaSdaSan faqlu &ola, fabdalaSdaSan &ibgo &olaro. 233. ГIакъилассе вокьула жиндасса гIакъилав чи, хханассе бокьула бищунго гIакъилавлъун живго вукIине. faqilaSe wopula $indaSa faqilaw xi, {anaSe bopula bi&ungo faqilaw;un $iwgo wujine. 234. ГIакъилассе – ишан, гIабдалассе – бугI-бугI. faqilaSe - i^an, fabdalaSe - buf-buf. 235. ГIакъилассе къварилъи – гIабдалассе роххел. faqilaSe qwari;i - fabdalaSe ro{el. 236. ГIакъилассул газа кьурдаги рекIунеб, лълъим лъалессул квер гIордаги балеб. faqilaSul ga#a purdagi rejuneb, :im ;aleSul kwer fordagi baleb. 237. ГIакъилассул гIакълу къалмиццаги бицунеб. faqilaSul faqlu qalmiCagi bicuneb. 238. ГIакъилассул гIакълу рекIелI букIуна, гIабдалассул гIакълу мацIцIалда букIуна. faqilaSul faqlu reje/ bujuna, fabdalaSul faqlu ma~alda bujuna. 239. ГIакъилассул къассдал дагьал, къассдал гIемерассул гIакълу дагьаб. faqilaSul qaSdal dahal, qaSdal gemeraSul faqlu dahab. 240. ГIакъилассда рагIи рагIал баккарабго бичIчIулеб, гIабдалассда бугIизе кколеб. faqilaSda rafi rafal baKarabgo biZuleb, fabdalaSda bufi#e Koleb. 241. ГIакъилассул ссабру кIудияб, жагьилассул ццин ххеххаб. faqilaSul Sabru judiyab, $ahilaSul Cin {e{ab. 242. ГIакъиласс ункъо жо гьитIинаблъун рикIкIунареб - цIаги, унтиги, тушманлъиги, налъиги. faqilaS unqgo $o hiTinab;un riJunareb - `agi, untigi, tu^man;igi, na;igi. 243. ГIакъилассул хвел цо буго. faqilaSul [wel co bugo. 244. ГIакъилассул хIалтIи гIемераб, гIабдалассул чIанда гIемераб. faqilaSul \alTi femerab, fabdalaSul zanda femerab. 245. ГIакъилги къосунев, гIабдалассулги цIцIодораб жо кколеб. faqilgi qosunew, fabdalaSulgi ~odorab $o Koleb. 246. ГIакъилгун ургъун давла босе, гIабдалгун ургъун балагь тIаде цIцIаге. faqilgun urvun dawla bose, fabdalgun urvun balah Tade ~age. 247. ГIакъилзаби гIемерлъиялълъ гIакълу босизе чиго гьечIого ххутIун ругила. faqil#abi femer;iya: faqlu bosi#e xigo hezogo {uTun rugila. 248. ГIакъиллъи ботIролI бугев ссабруялда хьвадула, ссабруялда хьвадарав мурадалде вахуна. faqil;i boTro/ bugew Sabruyalda %wadula, Sabruyalda %wadaraw muradalde wa[una. 249. ГIакъиллъи тIаде ккола, ахIмакълъи гъоркье ккола. faqil;i Tade Kola, a\maq;i vorpe Kola. 250. ГIакълу бугел кантIулел, жо бичIчIулез росулел жалила кицаби. faqlu bugel kanTulel, $o biZule# rosulel $alila kicabi. 251. ГIакълу бикъулареб, я гIодобе бортулареб. faqlu biqulareb, ya fodobe bortulareb. 252. ГIакълу бикьулелълъул бакъалда тарав, намус бикьулелълъул гьоркьов ххутIарав. faqlu bipule:ul baqalda taraw, namus bipule:ul horpow {uTaraw. 253. ГIакълу бикьулелълъул нахъа ххутIарай, ххабар бикьулелълъул ццее кIанцIарай. faqlu bipule:ul na]a {uTaray, {abar bipule:ul Ceye jan`aray. 254. ГIакълу ботIрол кIодолъиялда бараб букIунебани, ганщил бищунго кIудияб букIинаанила. faqlu boTrol jodo;iyalda barab bujunebani, gan&il bi&ungo judiyab bujinaanila. 255. ГIакълу бугев инссуцца вас бергьине толарев. faqlu bugew inSuCa was berhine tolarew. 256. ГIакълу бугила нилIее къваригIараб меххалълъ чияхъ батулеб, чияе къваригIараб меххалълъ нилIехъ батулеб жо. faqlu bugila ni/eye qwarifarab me{a: xiya] batuleb, xiyaye qwarifarab me{a: ni/e] batuleb $o. 257. ГIакълу гьаре, боцIцIи гьаруге. faqlu hare, bo~i haruge. 258. ГIакълу гьечIеб бетIер, чIобогояб ракI, гIадалал ххиялаз хвана гIадада. faqlu hezeb beTer, zobogoyab raj, fadalal {iyala# [wana fadada. 259. ГIакълу гьечIеб бетIералда жаниб бугеб гIелму – бетIер гьечIеб къаркъалаялда лъураб тIагъур. faqlu hezeb beTeralda $anib bugeb felmu - beTer hezeb qarqalayalda ;urab Tavur. 260. ГIакълу гьечIеб къаркъала – къебелъухъ лълъадаричIеб нус. faqlu hezeb qarqala - qebe;u] :adarizeb nus. 261. ГIакълу гьечIеб гьавали гьаваялда хьвадула. faqlu hezeb hawali hawayalda %wadula. 262. ГIакълу гьечIев «гIакъил», бо гьечIев «ццевехъан». faqlu hezew «faqil», bo hezew «Cewe]an» 263. ГIакълу гьечIев васассдасса гьевги хун гьабураб бахъухъ лълъикIаб. faqlu hezew wasaSdaSa hewgi [un haburab ba]u] :ijab. 264. ГIакълу гьечIевгIан чи мекъав вукIуневила. faqlu hezewfan xi meqaw wujunewila. 265. ГIакълу гьечIей бика – рахь гьечIеб гIака. faqlu hezey bika - ra% hezeb faka. 266. ГIакълу гьечIел данде чIвагеги, гIажал щварал цадахъ ккогеги. faqlu hezel dande zwagegi, fa$al &waral cada] Kofogegi. 267. ГIакълу гьечIессе гIакълу кьоге. faqlu hezeSe faqlu poge. 268. ГIакълу гьечIессул берал гIемер гIодулел. faqlu hezeSul beral femer fodulel. 269. ГIакълу гьикъизе херав чи гьечIони, хераб хIохьода гьикъе. faqlu hiqi#e [eraw xi hezoni, [erab \o%oda hiqe. 270. ГIакълу гIемерассул калам дагьаб. faqlu femeraSul kalam dahab. 271. ГIакълу гIолеб гьечIони, ганчIида гьикъунги, гьикъичIого тоге. faqlu foleb hezoni, ganzida hiqungi, hiqizogo toge. 272. ГIакълу дагьал, цIцIалукагътал щварал жал рихьулахха, дир лъимал, нуж! (Ххунзахъа Аталазул Катуралълъ абурал кицилъун лIугьарал рагIаби). faqlu dahal, ~alukavtal &waral $al ri%ula{a, dir ;imal, nu$! ({un#a]a atala#ul katura: abural kici;un /uharal rafabi). 273. ГIакълу дагьассул мацIцI кIудияб. faqlu dahaSul ma~ judiyab. 274. ГIакълу дагьассул рагIи гIемераб. faqlu dahaSul rafi femerab. 275. ГIакълу заргIанав – гIамал зобгIанав. faqlu #arfanaw - famal #obfanab. 276. ГIакълу – къокъаб, чIанда – ххалатаб. faqlu - qoqab, zanda - {alatab. 277. ГIакълу къокъассул мацIцI ххалатаб. faqlu qoqaSul ma~ {alatab. 278. ГIакълу кьеги къвачIа цIун, къвачIа кьеги гIарцул цIун. faqlu pegi qwaza `un, qwaza pegi farcul `un. 279. ГIакълу ресалълъ малълъулеб. faqlu resa: ma:uleb. 280. ГIакълу саналI гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu sana/ gurebila bujuneb, boTro/ila. 281. ГIакълу тIагърикь гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu Tavrip gurebila bujuneb, boTro/ila. 282. ГIакълу тIатине ссабруги кьеги, ссабру алжаналълъул кIул букIин лъазе гъваридаб пикруги кьеги. faqlu Tatine Sabru pegi, Sabru al$ana:ul jul bujin ;a#e vwaridab _ikrugi pegi. 283. ГIакълу – ццебе, ццин – нахъе. faqlu - Cebe, Cin - na]e. Цо росулI гIумру гьабулел рукIанила эбелги васги. Ххеххгого россги хун, гьев васассе гIумру бичарай гIадан йикIанила эбел. Балугълъиялде вас вахиндал, чIчIужу ячине йигин, дир вас, диеги кумек букIинеян лIугьанила эбел. Вас разилъулев вукIинчIила. Эбелни тIасса йичIичIелълъул, цо релълъаралда рекъараб бакIги тIасса бищун, чIчIужуги ячанила, бертинги гьабунила. Гьедин дагьал моцIцIал анила. co rosu/ fumru habulel rujanila ebelgi wasgi. {e{gogo roSgi [un, hew wasaSe fumru bixaray fadan yijanila ebel. baluv;iyalde was wa[indal, Zu$u yaxine yigin, dir was, diyegi kumek bujineyan /uhanila ebel. was ra#i;ulew wujinzila. ebelni TaSa yizize:ul, co re:aralda reqarab bajgi TaSa bi&un, Zu$ugi yaxanila, bertingi habunila. hedin dahal mo~al anila. Цо къоялълъ, сапаралдасса вуссиндал, гьессда эбелалълъул берал риччун рихьанила. Щиб-кинилан цIеххедал, щибго гьечIин, херал руччабазул берал чваххулин, гьедин батилилан, тIасса вихьизавунила гьелълъ вас. КIиабилеб къоялълъги гьединго кканила. Щаклъун васасс ххал ккунила. Эбелалълъ цо абулила, нусалълъ анцIго гIезабулила… co qoya:, sa_araldaSa wuSindal, heSda ebela:ul beral riXun ri%anila. &ib-kinilan `e{edal, &ibgo hezin, [eral ruXaba#ul beral xwa{ulin, hedin batilin, TaSa wi%i#awunila he: was. jiabileb qoya:gi hedin Kanila. &ak;un wasaS {al Kunila. ebela: co abulila, nusa: an`go fe#abulila... Гьа, гьадинищхха иш букIарабилан, ццин бахъанила васассул. Дицца дуда абунин дие лълъади ячунгейилан, дуццаго ячанин, гьанже лълъикIго рукIайин, дун нужеда тIокIав вихьулариланги абун, унаго-унаго вас рикIкIаде, цо базаргабазул росулIе щванила. Гьенив цо бечедав базарганасс жиндирго ххамил тукада вичаризе тIамунила. Гьедин анила чанго сон. ha, hadini&{a i^ bujarabilan, Cin ba]anila wasaSul. diCa duda abunin diye :adi yaxungeyila, duCago yaxanin, han$e :ijgo rajayin, dun nu$eda Tojaw wi%ularilangi abun, unago-unago was riJade, co ba#argaba#ul rosu/e &wanila. heniw co bexedaw ba#arganaS $indirgo {amil tukada wixari#e Tamunila. hedin anila xango son. Цо къоялълъ базарганассда гьав, кIалдиб полопги бан, квешго лIугьун ватанила. Щиб-кинилан гьикъидал, валагьин, эбелги ракIалде щванин, гьелълъ тамахлъизе гьавунилан бицанила. co qoya: ba#arganaSda haw, jaldib _olo_gi ban, kwe^go /uhun watanila. &ib-kinilan hiqidal, walahin, ebelgi rajalde &wanin, he: tama[;i#e hawunilan bicanila. «Рокъове тIад вуссине бокьиларищ дуе?» – ян цIехханила базарганасс. Бокьилаанилан жаваб кьунила гьассги. РекIине чуги кьунила, базе ярагъги кьунила. ЛълъикIаб бихьун ххамил ххулжалги цIезарунила. «Дуда тIад вуссине ракIалде ккани, эбелги лълъадиги цадахъ рачун, гьанивеги вачIа. Сордо кIудияссул гIакълуги цIцIикIкIарабилан абулелълъул, цо дихъги гIенеккеян, - абунила базарганасс, - росулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. Гьоболассда къваригIел гьечIеб жоги цIеххоге, ццин нахъе ккезабуни, мун мекъссаги ккеларо. Гьанже дуе нух битIаги», – ян гьессул квер босанила. «roqowe Tad wuSine bopilari& duye?» - yan `e{anila ba#arganaS. bopilaanilan $awab punila haSgi. rejine xugi punila, ba#e yaravgi punila. :ijab bi%un {amil {ul$algi `e#arunila. «duda Tad wuSine rajalde Kani, ebelgi :adigi cada] raxun, haniwegi waza. sordo judiyaSul faqlugi ~iJarabilan abule:ul, co di]gi feneKeyan, - abunila ba#arganaS, - rosu/e &we#e res bujago, qwaTiwgi Zoge, rosu riJad bujin ;alago, qaSi nu[dagi wa]unge. hobolaSda qwarifel hezeb $ogi `e{oge, Cin na]e Ke#abuni, mun meqSagi Kelaro. han$e duye nu[ biTagi», - yan heSul kwer bosanila. Гьедин гьасс ватIаналде сапар бухьанила. Гьессда нухда цадахъ кканила, варанабазда лъун гIемераб къайи-къоногун, гьеб бичизе унел базаргаби. ЛълъикIго ссваканги рукIун, сордоги щолеб букIун, цо ссанагIатаб бакIалда рещтIине ракIалде кканила къайицадахъазда. Гьасс абунила, жинда гьабзазул хIапиги хIелказул гIегIедиги рагIанин, гIагардегIан росу батиялда щаклъи гьечIин, гьанир рещтIун лълъикI гурилан. Васассул гIакълуялълъухъ гьел гIенеккичIила, гьенирго чIчIанила. hedin haS waTanalde sa_ar bu%anila. heSda nu[da cada] Kanila, waranaba#da ;un femerab wayi-qonogun, heb bixi#e unel ba#argabi. :ijgo Swakan rujun, sordogi &oleb bujun, co Sanafatab bajalda re&Tine rajalde Kanila qayicada]a#da. haS abunila, $inda hab#a#ul \a_igi \elka#ul fefedigi rafanin, fagardefan rosu batiyalda &ak;i hezin, hanir re&Tun :ij gurilan. wasaSul faqluya:u] hel feneKizila, henirgo Zanila. Вас росулIе вилълъанила. Саламги кьун, росдал годекIаниве щванила. Рокъо-рокъоре гIадамалги ун, цо чи ххутIанила, кагътида тIад лъураб гьанал кесекги кодоб ккун, гьенивго. Гьобол вугищан гьикъанила гьесс васассда. ГьечIилан гьессги жаваб кьунила. ХIинкъиларев ватани, дида цадахъ вилълъаян абунила гьев чиясс. Щай хIинкъулев, мунги дунго гIадав гIадан гурищилан, ххадуб чуги цIцIан, гьавги гьессда ххадув анила. was rosu/e wi:anila. salamgi pun, rosdal godejaniwe &wanila. roqo-roqore fadamalgi un, co xi {uTanila, kavtida Tad ;urab hanal kesekgi kodob Kun, heniwgo. hobol wugi&an hiqanila heS wasaSda. hezilan heSgi $awab punila. \inqilarew watani, dida cada] wi:ayan abunila hew xiyaS. &ay \inqulew, mungi dungo fadaw fadan guri&ilan, {adub xugi ~an, hawgi heSda {aduw anila. Азбаралълъуре лIугьиндал, гьой гIадин раххссидаги бан, хIапулей йигила чIчIужугIадан. БетIергьанчиясс гьей раххссидасса йичанила. Жанире щванила. Таххида тIад, гIадан гIадин, бегун бугила гьой. Гъой чIчIужуялълъ гьоболассул чодуе кIалцIи-ххерги банила. Доб гьанги белъун, ххинкIалги гьарунила, квенги гьазда ццебе лъунила. Цинги рукъалълъул бетIергьанасс чIчIужугIадан йикIаралълъуйго юхьанила. Ххадур кIиялгоги квананила, ххутIараб ракьа-макъарги чуриги дой чIчIужуялълъеги кьунила. a#bara:ure /uhindal, hoy fadin ra{Sidagi ban, \a_uley yigila Zu$ufadan. beTerhanxiyaS hey ra{SidaSa yixanila. $anire &wanila. ta{ida Tad, fadan fadin, begun bugila hoy. voy Zu$uya: hobolaSul xoduye jal`i-{ergi banila. dob hangi be;un, {injalgi harunila, kwengi ha#da Cebe ;unila. cingi ruqa:ul beTerhanaS Zu$ufadan yijara:uygo yu%anila. {adur jiyalgogi kwananila, {uTarab rapa-maqargi xurigi doy Zu$uya:egi punila. Къасси макьуги щвечIила васассда, кин букIаниги хIал лъазеги течIила, радал вахъун нухда ине къачIанила. Додинго кваназеги гьавун, инехъин вукIарав вас гьоболасс тIад вуссине гьавунила. - Дуда гьаниб щибго гIажаиблъи гьабизе жого бихьичIищ? – ан гьикъанила. - Валлагь, дуда берцин бихьараб гуреяб, дида щибго гIажаибаб жо бихьичIо, – ян чIчIанила гьав. - Гьанже дида ххадув вачIа, – ян цо гвенд бихьизабунила гьасс гьоболассда. Цо рахъалде бутIрул, цоги рахъалде къаркъалаби ран ругила чIварал чагIазул. – КъваригIел гьечIеб жо цIеххон вукIарабани, мунги гьазда асскIов вукIинаан. Мун цIцIодорав чи вихьула, дицца дуда кинабго бицина. qaSi mapugi &wezila wasaSda, kin bujanigi \al ;a#egi tezila, radal wa]un nu[da ine qazanila. dodingo kwana#egi hawun, ine]in wujaraw was hobolaS Tad wuSine hawunila. - duda hanib &ibgo fa$aib;i habi#e $ogo bi%izi&? - an hiqanila. - walah, duda bercin bi%arab gureyab, dida &ibgo fa$aibab $o bi%izo, - yan Zanila haw. - han$e dida {aduw waza, - yan co gwend bi%i#abunila haS hobolaSda. co ra]alde buTrul, cogi ra]alde qarqalabi ran rugila zwaral xafa#ul. - qwarifel hezeb $o `e{on wujarabani, mungi ha#da aSjow wujinaan. mun ~odoraw xi wi%ula, diCa duda kinabgo bicina. Гьагъай гIадан дир яццгIал йиго. Ниж гьитIинго рукIаго, хвана нижер эбел-эмен. Гьелълъул эбелалълъ холелълъул дида гьарана кIудияй гIезегIан гьелълъул тIалаб гьабейила, ваццги яццги гIадинги рукIайилан. КIудиял гIедалги, бокьани, дуего тейила, бокьичIони, абун вачIарассе кьейила. Абун чи вачIиндал, дицца гьелда гьикъана - «Мун гьессиейищ кьелей, диегойищ телей?» – ян. «Дуего те», – ян абуна гьелълъ. Диццаги гьедин гьабуна. havay fadan dir yaCfal yigo. ni$ hiTingo rujago, [wana ni$er ebel-emen. he:ul ebela: [ole:ul dida harana judiyay fe#efan he:ul Talab habeyila, waCgi yaCgi fadin rujayila. judiyal fedalgi, bopani, duyego teyila, bopizoni, abun wazaraSe peyila. abun xi wazindal, diCa helda hiqana - «mun heSiyeyi& peley, diyegoyi& teley?» - yan. «duyego te», - yan abuna he:. diCagi hedin habuna. Дун кьижун ккаравго, гьей къватIие уней йикIун йиго. Щаклъун цо сордоялълъ ххадуб ххал ккуна. Росу рагIалда бугеб цо рокъое тIерхьун гьейги ана, ххадувго дунги вилълъана. dun pi$un Karawgo, hey qwaTiye uney yijun yigo. &ak;un co sordoya: {adub {al Kuna. rosu rafalda bugeb co roqoye Ter%un heygi ana, {aduwgo dungi wi:ana. Дицца нуцIцIа ричIеян ахIана. РичIизе рахараб гурилан ахIана жаниссан. Бараб малалълъ нуцIцIаги речIчIизабун, дун жаниве кIанцIана. Жанив вукIарав дида тIад речIчIана. Гьессдасса дун къолев вукIана. Дицца гьелда гьарана дие дагьаб кумек гьабеян. Гьелълъни гьабичIо. Дида ххадуб бачIун букIун буго гьаб гьой. РечIчIун тIадгун, гьелълъ гьев тIутIун вана. Гьеб къоялдасса нахъе дицца гьей раххссида бана, гьелълъул бакIалда гьой рокъобеги бачана. ЯццгIал йикIун, чIвазеги кIвечIо, – ян лIугIизабунила гьесс жиндирго ххабар. diCa nu~a rizeyan a\ana. rizi#e ra[arab gurilan a\ana $aniSan. barab mala: nu~agi reZi#abun, dun $aniwe jan`ana. $aniw wujaraw dida Tad reZana. heSdaSa dun qolew wujana. diCa helda harana diye dahab kumek habeyan. he:ni habizo. dida {adub bazun bujun bugo hab hoy. reZun Tadgun, he: hew TuTun wana. heb qoyaldaSa na]e diCa hey ra{Sida bana, he:ul bajalda hoy roqobe baxana. yaCfal yijun, zwa#egi jwezo, - yan /ufi#abunila heS $indirgo {abar. Вас нухда вахъанила. Дол цадахъ рукIарал базаргаби, хъачагъалги тIаде кIанцIун, кодосса къайиги бахъун, ратанила. Щванила гьав жиндирго росулIе. Рукъалълъул кIалтIеги ун, гордухъан жаниве валагьанила. Дой гьассул чIчIужуги йигила гIодой йикIун. Гьелълъул накабазда бетIерги лъун, кьижун цо гIолохъанчиги вугила, гьессул бетIер лълъухьулей гьейги йигила. was nu[da wa]anila. dol cada] rujaral ba#argabi, ]axavalgi Tade jan`un, kodoSa qayigi ba]un, ratanila. &wanila haw $indirgo rosu/e. ruqa:ul jalTegi un, gordu]an $aniwe walahanila. doy haSul Zu$ugi yigila fodoy yijun. he:ul nakaba#da beTergi ;un, pi$un co folo]anxigi wugila, heSul beTer :u%uley heygi yigila. Цин ххиял гьабунила, бахъун хханжаргун, жаниве кIанцIизе, нахъеги ургъанила, базарганассул гIакълу гIадахъ босиялълъ гьанжелъагIанги мекъи ккечIин, гьаб нухалълъги, гIакълу ццебе, ццин нахъе ккезабун лълъикIилан кканила. Гьав эбелалълъухъе вилълъанила. Гьобол вокьиларищан, жаниве лIугьанила. Валлагь, вокьилинхха, нусго вугонигиян, херай разиго данде яхъанила. cin {iyal habunila, ba]un {an$argun, $aniwe jan`i#e, na]egi urvanila, ba#arganaSul faqlu fada] bosiya: han$e;afangi meqi Kezin, hab nu[a:gi, faqlu Cebe, Cin na]e Ke#abun :ijanilan Kanila. haw ebela:u]e wi:anila. hobol wopilari&an, $aniwe /uhanila. walah, wopilin{a, nusgo wugonigiyan, [eray ra#igo dande ya]anila. Квана-гьекъон вахъаравго, гьав цIеххолданила, дур лъимал-чагIиго гьечIищин, нахъе щал ругелилан. Гьалълъги ккараб жо бицанила, васги вукIанин жиндир. Цо пайда гьечIеб кIалъай жиндирги нусалълъулги ккунилан, къватIиве арав гьевги тIокIав тIад вуссинчIила. ГIемер мехх иналде нусалълъ месед гIадав васги гьавунила. Гьанже гьез тIалаб-агъазги гьабун, жийги йигила, васассулги щибго ххабар лъачIила. kwana-heqon wa]arawgo, haw `e{oldanila, dur ;imal-xafigo hezi&an, na]e &al rugelilan. ha:gi Karab $o bicanila, wasgi wujanin $indir. co _ayda hezeb ja;ay $indirgi nusa:ulgi Kunilan, qwaTiwe araw hewgi Tojaw Tad wuSinzila. femer me{ inalde nusa: mesed fadaw wasgi hawunila. han$e he# Talab-ava#gi habun, $iygi yigila, wasaSulgi &ibgo {abar ;azila. Гьеле гьев вас жив вугилан, эбелалда гьавги ххурхханила. Гьеб меххалдасса нахъе эбелги, васги, хъизанги цадахъ талихIаб гIумруялда ругила. hele hew was $iw wugilan, ebelalda hawgi {ur{anila. heb me{aldaSa na]e ebelgi, wasgi, ]i#angi cada] tali\ab fumruyalda rugila. 284. ГIакълу цIцIикIкIарассул гIамал гьитIинаб. faqlu ~iJaraSul famal hiTinab. 285. ГIакълу цIцIикIкIарассул нигат бацIцIадаб. faqlu ~iJaraSul nigat ba~adab. 286. ГIакълуги пагьмуги хIуруцца баххчулареб. faqlugi _ahmugi \uruCa ba{xulareb. 287. ГIакълуялда къуват бащалъулеб жо гьечIебила. faqluyalda quwat ba&a;uleb $o hezebila. 288. ГIакълуялълъул бетIергьан хIасад гьечIеб вукIуна. faqluya:ul beTerhan \asad hezeb wujuna. 289. ГIакълуялълъул эбел – калам дагь гьаби, дарабазул эбел – квен дагь гьаби. faqluya:ul ebel - kalam dah habi, daraba#ul ebel - kwen dah habi. 290. ГIакъуба бихьичIесс къо хIехьолареб. faquba bi%izeS qo \e%olareb. 291. ГIала бекерун цIцIар босиларо, цIцIуяй гьаюдун рукъ бечелъиларо. fala bekerun ~ar bosilaro, ~uyay hayudun ruq bexe;ilaro. 292. ГIала – чармил, чу – маххул. fala - xarmil, xu - ma{ul. 293. ГIалимчи гIалимчияссда лъала, гIакъил гIакъилассда лъала, гIарцул бацIцIалъи къебедассда лъала. falimxi falimxiyaSda ;ala, faqil faqilaSda ;ala, farcul ba~a;i qebedaSda ;ala. 294. ГIалимзабазда асскIов – жагьилчи, жагьилзабазда асскIов – гIалимчи. falim#aba#da aSjow - $ahilxi, $ahil#aba#da aSjow - falimxi. 295. ГIалимчи вукIине кколев гьулчун бачIунеб ралъад гIадавги щун бачIунеб гIор гIадавги. falimxi wujine Kolew hulxun bazuneb ra;ad fadawgi &un bazuneb for fadawgi. 296. ГIалимчи лъалев живго гIадав гIалимчияссда, устар лъалев живго гIадав устарассда. falimxi ;alew $iwgo fadaw falimxiyaSda, ustar ;alew $iwgo fadaw ustaraSda. 297. ГIалимчиги вукIунев, цо-цо цIцIалунчиги вукIунев. falimxigi wujunew, co-co ~alunxigi wujunew. 298. ГIалихъиличил хъиртIеги ине бегьула яс гьаризе, Хъарагищил гьинтIеги ине бегьула. fali]ilixil ]irTegi ine behula yas hari#e, ]aragi&il hinTegi ine behula. 299. ГIалххуда мокъокъги къороллъугеги, мокъокъил тIанчIиги бессдаллъугеги. fal{uda moqoqgi qorol;ugegi, moqoqil Tanzigi beSdal;ugegi. 300. ГIалххудаги берал ругел, къададаги гIундул ругел. fal{udagi beral rugel, qadadagi fundul rugel. 301. ГIалххул чанги цIунулеб жибго жинццаго, гIонкIкIол тIинчIги цIунулеб жибго жинццаго. fal{ul xangi `unuleb $ibgo $inCago, fonJol Tinzgi `unuleb $ibgo $inCago. 302. ГIамал бихьун хIалтIе, хIал бихьун хьвагIе. famal bi%un \alTe, \al bi%un %wafe. 303. ГIамал гьечIев гIалимчи – бакъ гьечIеб рагIад. famal hezew falimxi - baq hezeb rafad. 304. ГIамал зобгIан кIудияссда гIакълу заргIан гурони букIунаребила. famal #obfan judiyaSda faqlu #arfan guroni bujunarebila. 305. ГIамал къадаразе гьабураб лълъикIлъи – дуйго квешлъиялълъе батулеб бакIлъи. famal qadara#e haburab :ij;i - duygo kwe^;iya:e batuleb baj;i. 306. ГIамал кIудияв, гьунар гьитIинав. famal judiyaw, hunar hiTinaw. 307. ГIамал кIудияв чи – гIадамазул тушман, лIар бегIераб хIайван – хIайваназул тушман. famal judiyaw xi - fadama#ul tu^man, /ar beferab \aywan - \aywana#ul tu^man. 308. ГIамал кIудияссул гIакълу гьитIинаб. famal judiyaSul faqlu hiTinab. 309. ГIамал лълъикIаб чода нахъа-ццере рекIунел. famal :ijab xoda na]a-Cere rejunel. 310. ГIамал рекъечIеб ригьиналдассаги цIунаги, цIуна-къай гьечIеб хъизаналдассаги цIунаги. famal reqezeb rihinaldaSagi `unagi, `una-qay hezeb ]i#analdaSagi `unagi. 311. ГIамал рекъонила къадарги хъвалеб. famal reqonila qadargi ]waleb. 312. ГIамал рекъолареб къадаралдасса, къадарги щун хабалIе инго лълъикI. famal reqolareb qadaraldaSa, qadargi &un [aba/e ingo :ij. 313. ГIамалалда рекъарабила гIумруги букIунеб. famalalda reqarabila fumrugi bujuneb. 314. ГIамалалълъ басра гьавурав асс-къоялълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw aS-qoya: jodo hawularew. 315. ГIамалалълъ басра гьавурав насибалълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw nasiba: jodo hawularew. 316. ГIамаликъаб цIцIуяб жоялдассаги цIунаги, цIцIад гьечIеб рииялдассаги цIунаги. famaliqab ~uyab $oyaldaSagi `unagi, ~ad hezeb riiyaldaSagi `unagi. 317. ГIанабазда гIи хьихьуларо, гъалазда чу бухьунаро. fanaba#da fi %i%ularo, vala#da xu bu%unaro. 318. ГIанкIкI гьойдасса хIинкъарабила, гьой гIанкIкIидасса хIинкъарабила. fanJ hoydaSa \inqarabila, hoy fanJidaSa \inqarabila. 319. ГIанкIкI кколареб жоялълъ цер кквеларо. fanJ Kolareb $oya: cer Kwelaro. 320. ГIанкIкI чIвазе унелълъул, бацI чIвазе гIадин айила. fanJ zwa#e une:ul, ba` zwa#e fadin ayila. 321. ГIанкIкIгун вагъизе, гъалбацIгун вагъизе гIадин къачIай. fanJgun wavi#e, valba`gun wavi#e fadin qazay. 322. ГIанкIкIида гIарада речIчIулареб, чIчIотIоде ххвалчен хьвагIулареб. fanJida farada reZulareb, ZoTode {walxen %wafulareb. 323. ГIанкIкIил бихьинлъи-цIцIулъи хханассда гурони лъаларебила. fanJil bi%in;i-~u;i {anaSda guroni ;alarebila. Гьалълъул магIна гуро ххан гIакъилав вугилан, ялъуни гьессул лъай цIцIикIкIараб бугилан абураб. МагIна буго, гьесс бихьинабан абураб бихьинабан тезе ккола, цIцIуябан абураб цIцIуябан тезе ккола, гьессие бокьаралда ххадур рилълъинчIого чара гьечIоян абураб. ХIакъикъаталда ххалкъалълъ жидедаго гьоркьов ххан маххссара-ххочIалълъе гьавулев вуго. ha:ul mafna guro {an faqilaw wugilan, ya;uni heSul ;ay ~iJarab bugilan aburab. mafna bugo, heS bi%inaban aburab bi%inaban te#e Kola, ~uyaban aburab ~uyaban te#e Kola, heSiye boparalda {adur ri:inzogo xara hezoyan aburab. \aqiqatalda {alqa: $idedago horpow {an ma{Sara-{oza:e hawulew wugo. 324. ГIанкIкIие хIетI кьалаб, мокъокъие кIал кьалаб. fanJiye \eT palab, moqoqiye jal palab. 325. ГIанкIкIицца чIвараб цIцIум, цIцIецца ккураб бацI. fanJiCa zwarab ~um, ~eCa Kurab ba`. 326. ГIанкIкIиццаги беццулеб жиндирго рукIун, гIонкIкIоццаги беццулеб жиндирго каратI. fanJiCagi beCuleb $indirgo rujun, fonJoCagi beCuleb $indirgo karaT. 327. ГIанкIу бикъарасс оцги бикъулебила. fanju biqaraS ocgi biqulebila. 328. ГIанкIу кинаб бугониги, хханил тIагIам цо букIунеб. fanju kinab bugonigi, {amil Tafam co bujuneb. 329. ГIанкIу къинлъулареб хоно гъоркь течIони, хIалтIуде гъира балареб рахъи гьечIони. fanju qin;ulareb [ono vorp tezoni, \alTude vira balareb ra]i hezoni. 330. ГIанкIу холеб хъирщадулаго, гIадан холев бечелъизе чIучIадулаго. fanju [oleb ]ir&adulago, fadan [olew bexe;i#e zuzadulago. 331. ГIанкIу чIчIегIераб бугониги, хоно хъахIаб гьабула. fanju Zeferab bugonigi, [ono ]a\ab habula. 332. ГIанкIудал мокъида мокъокъ чIчIоларо, хIамил руссуналда чу бухьунаро. fanjudal moqida moqoq Zolaro, \amil ruSunalda xu bu%unaro. 333. ГIанкIудал ханазул тIамуниги лал бокъунарев. fanjudal [ana#ul Tamunigi lal boqunarew. 334. ГIанкIуялълъ квегъулеб хIелеко. fanjuya: kwevuleb \eleko. 335. ГIанкIуялълъ хъирщи таниги, чиясс ругьунаб гIамал толареб. fanjuya: ]ir&i tanigi, xiyaS ruhunab famal tolareb. 336. ГIантаб рагIи тIад буссун дудаго речIчIулеб. fantab rafi Tad buSun dudago reZuleb. 337. ГIантаб суалалълъе жавабги гIантаб букIуна. fantab suala:e $awabgi fantab bujuna. 338. ГIантаб томеналдасса цIцIодораб шагьи лълъикIаб. fantab tomenaldaSa ~odorab ^ahi :ijab. 339. ГIантав бахIарчияссдасса хIинкъарав цIцIодор лълъикIав. fantaw ba\arxiyaSdaSa \inqaraw ~odor :ijaw. 340. ГIантав вукIа абе, гIадалав вукIа абе – цого жо. fantaw wuja abe, fadalaw wuja abe - cogo $o. 341. ГIантав гьудулассдасса цIцIодорав тушманго лълъикIавила. fantaw hudulaSdaSa ~odoraw tu^mango :ijila. 342. ГIантал чагIи гьечIони, гIакъилассе боцIцIи кисса щвелеб? fantal xafi hezoni, faqilaSe bo~i kiSa &weleb? 343. ГIантасс лълъади какулейила, квешасс гьудул какулевила. fantaS :adi kakuleyila, kwe^aS hudul kakulewila. 344. ГIантассда цIеххезе кколареб, цIеххечIониги гьесс жинццаго бицунеб. fantaSda `e{e#e Kolareb, `e{ezonigi heS $inCago bicuneb. 345. ГIантассе – бухъарабго хоб, чIварабго лахIту. fantaSe - bu]arabgo [ob, zwarabgo la\tu. 346. ГIантассе кици тIамуни, гьелълъул магIнаги бицине кколебила. fantaSe kici Tamuni, he:ul mafnagi bicine Kolebila. 347. ГIаракъи – ургьибе, гIакълу – гьаваялде. faraqi - urhibe, faqlu - hawayalde. 348. ГIаракъидул шишаялълъ борлIулареб къед гьечIебила. faraqidul ^i^aya: bor/ulareb qed hezebila. 349. ГIарахъмагIардаги ссверун ралагье (ссверухъе ралагьичIого, рагIи кьвагьун биччаге). fara]mafardagi Swerun ralahe (Sweru]e ralahizogo, rafi pwahun biXage). 350. ГIарац балагьизе бигьаяб, кквезе захIматаб жойила. farac balahi#e bihayab, Kwe#e #a\matab #oyila. 351. ГIарац бекьани, месед бижулеб. farac bepani, mesed bi$uleb. 352. ГIарац бугев гуревила бечедав, гIакълу бугевила. farac bugew gurewila bexedaw, faqlu bugewila. 353. ГIарац бугессул рилълъингицин батIияб. farac bugeSul ri:ingicin baTiyab. 354. ГIарац бугони, магIардаги ах гьабула. farac bugoni, mafardagi a[ habula. 355. ГIарац гьечIессе буххча ссундуе, нич гьечIессе ххабар ссундуе? farac hezeSe bu{xa Sunduye, nix hezeSe {abar Sunduye? 356. ГIарац гьечIев чияссул чвантил кIалтIу къваридаб. farac hezew xiyaSul xwantil jalTu qwaridab. 357. ГIарац гьечIолъи – гIагарал чагIи гьечIолъи. farac hezoni - fagaral xafi hezoni. 358. ГIарац гIемерлъиялдасса гьудулзаби гIемерлъи лълъикIаб. farac femer;iyaldaSa hudul#abi femer;i :ijab. 359. ГIарац дагьаб бугониги гIола, гIемерлъанищ, гьелълъие гIей гьечIеб. farac dahab bugonigi fola, femer;ani&, he:iye fey hezeb. 360. ГIарац жо гуро, живго чи вукIине ккола. farac $o guro, $iwgo xi wujine Kola. 361. ГIарац кьавуцца кварав (ГIарцуда кьаву чIварав). farac pawuCa kwaraw (farcuda pawu zwaraw). 362. ГIарац кьун босараб жойилан, жугьтIицца ссапун кварабила. farac pun bosarab $oyilan, $uhTiCa Sa_un kwarabila. 363. ГIарац кIалъалеб меххалълъ, ритIухълъи буцIцIун чIчIола. farac ja;aleb me{a:, riTu];i bu~un Zola. 364. ГIарац рикIкIун босе, ххам борцун босе. farac riJun bose, {am borcun bose. 365. ГIарац тIагIинабизеги, чу хIалакъ гьабизеги – бигьаяб жо. farac Tafinabi#egi, xu \alaq habi#egi - bihayab $o. 366. ГIарац хъирис буго, букаричIого букIунаро. farac ]iris bugo, bukarizogo bujunaro. 367. ГIарац-меседалълъул багьа гьабизе бегьула, лълъикIаб рагIул багьа гьабун бажаруларо. farac-meseda:ul baha habi#e behula, :ijab raful baha habun ba$arularo. 368. ГIаркьел бекунилан, гъветI бакъвалареб. farpel bekunilan, vweT baqwalareb. 369. ГIарцул горал раниги, гуржи ганжалъиларо, горал рахъун лъуниги, хъирмил багьа хвеларо. farcul goral ranigi, gur$i gan$a;ilaro, goral ra]un ;unigi, ]irmil baha [welaro. 370. ГIарцул гьудуллъиги гьудуллъи гуребила, боцIцIул ригьинги ригьин гуребила. farcul hudul;igi hudul;i gurebila, bo~ul rihingi rihin gurebila. 371. ГIарцул квешлъи – гьечIолъи, гьанал квешлъи – хIалакълъи. farcul kwe^;i - hezo;i, hanal kwe^;i - \alaq;i. 372. ГIарцул кисаялдасса кIудияв чияссул гIакълу лълъикIаб. farcul kisayaldaSa judiyaw xiyaSul faqlu :ijab. 373. ГIарцул ссахIалдасса кIудияв чияссул гIакълу бергьунебила. farcul Sa\aldaSa judiyaw xiyaSul faqlu berhunebila. 374. ГIарцуцца бацIцIуна, боцIцIуцца чурула. farcuCa ba~una, bo~uCa xurula. 375. ГIарцуцца хханассул лагъги лагъассул хханги гьавулев. farcuCa {anaSul lav;i lavaSul {angi hawulew. 376. ГIатI бугони – ххинкIал, ххам бугони – ретIел. faT bugoni - {injal, {am bugoni - reTel. 377. ГIатI лълъамалъи – чохьол талихI. faT :ama;i - xo%ol tali\. 378. ГIатIада хIучч хъвалев, ххинкIазда гIуж балев. faTada \uX ]walew, {inja#da fu$ balew. 379. ГIатIалълъ лъурай гIунарай, гIазулI лъурай йорчIарай (гIуничIей). faTa: ;uray funaray, fa#u/ ;uray yorzaray (funizey). ХIинкьи букIун, эбелалълъ жиндирго яс гIатIалълъ яххчун йиго, бессдал яс, квачангIаги хвелародаян, гIазулI къазаюн йиго... \inqi bujun, ebela: $indirgo yas faTa: ya{xun yigo, beSdal yas, kwaxanfagi [welarodayan, fa#u/ qa#ayun yigo... 380. ГIатIго букIаго, кьуризе дидаги лъачIо, бакъвадго кьурулаго, къваркьан бекана (Хьопода кьуричIони, гIоркьида бекулеб). faTgo bujago, puri#e didago ;azo, baqwadgo purulago, qwarpan bekana (%o_oda purizoni, forpida bekuleb). 381. ГIатIго цIцIачIеб ботIил чIор, бучIулI цIцIани, бекула, борчIулI квер щвечIеб кеке хIасралъуда ххутIула. faTgo ~azeb boTil zor, buzu/ ~ani, bekula, borzu/ kwer &wezeb keke \asra;uda {uTula. 382. ГIатIиги тIатIиги – цого жо. faTigi TaTigi - cogo $o. 385. ГIатIидаб дунялалда кьечIеб талихI къваридаб хобалълъубги кьеларо. faTidab dunyalalda pezeb tali\ qwaridab [oba:ubgi pelaro. 386. ГIатIидал къоял ххеххго къокъунел, къваридал ун рахъунарел. faTidal qoyal {e{go qoqunel, qwaridal un ra]unarel. 387. ГIатIидассе кьурул нохъоги гIатIидаб, къваридассе тIолго дуниялги къваридаб. faTidaSe purul no]ogi faTidab, qwaridaSe Tolgo duniyalgi qwaridab. 388. ГIатIилъиялде ккани, къварилъи кIочон толеб. faTi;iyalde Kani, qwari;i joxon toleb. 389. ГIахьалаб гьойдасса нилIго бетIергьанаб кетого лълъикIила. fa%alab hoydaSa ni/go beTerhanab ketogo :ijila. 390. ГIачигъовулI вищарав, бакъанида реххарав (рехьед биххулI реххарав). faxivowu/ wi&araw, baqanida re{araw (re%ed bi{u/ re{araw). 391. ГIачиялълъе чу гъурай, чахъабалълъе росс гъурай. faxiya:e xu vuray, xa]aba:e roS vuray. 392. ГIачIрал гьаналги гьагIуйила, бачил гьаналги гьагIуйила. fazral hanalgi hafuyila, baxil hanalgi hafuyila. 393. ГIашилтIа Манташ гIадин. fa^ilTa manta^ fadin. Манташ вукIун вуго бечедав инссул вас, гьагав гIоркьилав. ГIолохъанлъиялде вахаралдасса нахъего тIеренаб дарайдул гвердилI реххулел рукIун руго Манташицца ххасалил кьварарал къоял. «Ххасало гвала ретIе, Манташ, риидал гвердилI вукIа!» – ян гIадамаз гIакълу кьураб меххалълъ, гьесс абулеб букIун буго ххасалил лъабго моцIцIалълъе гIоло Манташицца чIухIи гIодобе реххуларилан. Гьеб чIухIиялълъ Манташ нуха регIун вуго кIикъого соналълъул гIумруялде вахиналдего. manta^ wujun wugo bexedaw inSul was, hagaw forpilaw. folo]an;iyalde wa[araldaSa na]ego Terenab daraydul gwerdi/ re{ulel rujun rugo manta^iCa {asalil pwararal qoyal. «{asalo gwala reTe, manta^, riidal gwerdi/ wuja!» - yan fadama# faqlu purab me{a:, heS abuleb bujun bugo {asalil ;abgo mo~a:e folo manta^iCa zu\i fodobe re{ularilan. heb zu\iya: manta^ nu[a refun wugo joqogo sona:ul fumruyalde wa[inalde. Гьаб буго гIемерал магIарулазда гьоркьоб тIибитIун араб дандекквеялълъулаб кици. Кин, щиб хIалалда вугеван гьикъараб меххалълъ, тIассан борчIараб эркенлъиялда вугилан абураб магIнаялда, цо-цояз жаваб кьола ГIашилтIа Манташ гIадин вугилан. hab bugo femeral mafarula#da horpob TibiTun arab dandeKweya:ulab kici. kin, &ib \alalda wugewan hiqarab me{a:, TaSan borzarab erken;iyalda wugilan aburab mafnayalde, co-coya# $awab pola fa^ilTa manta^ fadin wugilan. 394. ГIащтIи хвезе ноцIцI гIадав, цIцIам гьечIеб чурпа гIадав. fa&Ti [we#e no~ fadaw, ~am hezeb xur_a fadaw. 395. ГIашура къваридаб, къурбан гIатIидаб. fa^ura qwaridab, qurban faTidab. 396. ГIашурадул моцIцIилан абула моцIцIрол соналълъул мухIарам моцIцIалде, къурбанаб моцIцIиланги абула зулхIижат моцIцIалде. Гьеб кIиябго моцIцIалда жаниб кколеб хис-басалълъул хIакъалълъулI буго кици. «МухIарам моцIцI кьерхадул, зулхIижат моцIцI роцIцIадул» абураб магIнаялдаги хIалтIизабула. fa^uradul mo~ilan abula mo~rol sona:ul mu\aram mo~olde, qurbanab mo~ilangi abula #ul\i$at mo~alde. heb jiyabgo mo~alda $anib Koleb [is-basa:ul \aqa:u/ bugi kici. «mu\aram mo~ per[adul, #ul\i$at mo~ ro~adul» aburab mafnayaldagi \alTi#abula. 397. ГIебуда зар баге, зазида хIетIе чIчIоге. febuda #ar bage, #a#ida \eTe Zoge. 398. ГIебуялдасса бегIераб жо – гIолохъанчияссул ракI, моххмоххидасса кьарияб жо – мегIер. febuyaldaSa beferab $o - folo]anxiyaSul raj, mo{mo{idaSa pariyab $o - mefer. 399. ГIебуялълъ гIебу борлIулареб. febuya: febu bor/ulareb. 400. ГIедал течIони, хведал толебила. fedal tezoni, [wedal tolebila. 401. ГIедал щарги чIвалеб, ккедал (щведал) чиги чIвалев. fedal &argi zwaleb, Kedal (&wedal) xigi zwalew. Ццебе, чабхъадул заманалда, Мусал ГIадалаван вукIун вуго цIцIар рагIарав ццевехъан. Чабхъад живги вачеян гьаризе арав цо гIолохъанчияссда гьев ватун вуго щар чIвалев. Cebe, xab]adul #amanalda, musal fadalawan wujun wugo ~ar rafaraw Cewe]an. xab]ad $iwgi waxeyan hari#e araw co folo]anxiyaSda hew watun wugo &ar zwalew. Дуцца, цIцIар рагIарав бахIарчиясс, щаргIаги щай чIвалебан гьикъараб меххалълъ, гьесс жаваб кьун буго. БахIарчи эбалълъе ясги вукIине кколев, ясалълъе россги вукIине кколев. ГIедал щарги чIвалеб нилIецца, ккедал чиги чIвалев нилIецца. duCa, ~ar rafaraw ba\arxiyaS, &arfagi &ay zwaleban hiqarab me{a:, heS $awab pun bugo. ba\arxi ebela:e yasgi wujine Kolew, yasa:e riSgi wujine Kolew. fedal &argi zwaleb ni/eCa, Kedal xigi zwalew ni/eCa. 402. ГIедал яс раса-цIцIалкIугун ягъулей. fedal yas rasa-~aljugun yavuley. 403. ГIедал яс россассе кье, яс йиго цIцIорол цIарагI. fedal yas roSaSe pe, yas yigo ~orol `araf. 404. ГIедал ясалълъе росс щваги, бокъиндал лалие гьури бачIаги. fedal yasa:e roS &wagi, boqindal laliye huri bazagi. 405. ГIедегIараб гважуцца беццаб когIо гьабулебила. fedefarab gwa$uCa beCab kofo habulebila. 406. ГIедегIараб гIанкIкI гьакицца кколеб. fedefarab fanJ hakiCa Koleb. 407. ГIедегIараб гIор ралъдахъе щолареб. fedefarab for ra;da]e &olareb. 408. ГIедегIун вачIарав гьобол гIедегIун уневила. fedefun wazaraw hobol fedefun unewila. 409. ГIедегIун гьабурабгIан, мурадалде щоларел. fedefun haburabfan, muradalde &olarel. 410. ГIедегIун хверхараб ххеххго биххулеб. fedefun [we[arab {e{go bi{uleb 411. ГIедегIунги гьабуге, гIададаги вукIунге. fedefungi habuge, fadadagi wujunge. 412. ГIей гьечIеб боцIцIиялдасса цIунаги. fey hezeb bo~iyaldaSa `unagi. 413. ГIейдал течIони, хвейдал толебила. feydal tezoni, [weydal tolebila. 414. ГIелалдего херлъарав, хвелалдего шапарав. felaldego [er;araw, [welaldego ^a_araw. 415. ГIелалълъ гIел ккола, кьералълъ кьер ккола. fela: fel Kola, pera: per Kola. 416. ГIелму асслу буго, пагьму кьучIчI буго, кьучIчIалда гурони къедги чIчIоларо. felmu aSlu bugo, _ahmu puZ bugo, puZalda guroni qedgi Zolaro. 417. ГIелму бигьаяб жояни, гIундулххалатиццаги гьабилаан. felmu bihayab $oyani, fundul{alatiCagi habilaan. 418. ГIелму бикъуларо, гIакълу бахъуларо. felmu biqularo, faqlu ba]ularo. 419. ГIелму бокьарассда макьу щоларо. felmu boparaSda mapu &olaro. 420. ГIелму бугев гIабдалги вукIунев, гIакълу бугев жагьилги ватулев. felmu bugew fabdalgi wujunew, faqlu bugew $ahilgi watulew. 421. ГIелму – гъветI, гIамал – пихъ. felmu - vweT, famal - _i]. 422. ГIелму гьечIеб ххалгIаталълъги лъай гьечIеб бетIералълъги чи алжаналълъуве вачинаро. felmu hezeb {alfata:gi ;ay hezeb beTera:gi xi al$ana:uwe waxinaro. 423. ГIелму гьечIев – рекъав, гIакълу гьечIев – беццав. felmu hezew - reqaw, faqlu hezew - beCaw. 424. ГIелму – гIакълуялълъул черхх. felmu - faqluya:ul xer{. 425. ГIелму гIодоб батулареб, гIакълу бичун босулареб. felmu fodob batulareb, faqlu bixun bosulareb. 426. ГIелму дагьав гIалимчи росугун къаццандула. felmu dahaw falimxi rosugun qaCandula. 427. ГIелму жавгьар буго, жагьлу загьру буго. felmu $awhar bugo, $ahlu #ahru bugo. 428. ГIелму – канлъи, жагьлу – бецIцIлъи. felmu - kan;i, $ahlu - be~;i. 429. ГIелму къарзалълъе кьолареб. felmu qar#a:e polareb. 430. ГIелму тIалаб гьабейила, киниялдассан байбихьун, лахIтуялде щвезегIан. felmu Talab habeyila, kiniyaldaSan baybi%un, la\tuyalde &we#efan. 431. ГIелму цIцIали – бигьаяб жо, гIадан лIугьин – захIматаб жо. felmu ~ali - bihayab $o, fadan /uhin - #a\matab $o. 432. ГIелмудал лълъалъ щвараб лъайги камилаб. felmudal :a; &warab ;aygi kamilab. 433. ГIакълудал нур гIураб гIадлуги лълъикIаб. faqludal nur furab fadlugi :ijab. 434. ГIелмуялдасса бергьараб жо – гIакълу. felmuyaldaSa berharab $o - faqlu. 435. ГIелмуялълъ гIакълу кьола, гIакълуялълъ пайда кьола. felmuya: faqlu pola, faqluya: _ayda pola. 436. ГIелмуялълъ гIодовегIанав чи тIадегIан гьавула, жагьиллъиялълъ тIадегIанав чи гIодовегIан гьавула. felmuya: fodowefanan xi Tadefan hawula, $ahil;iya: Tadefanaw xi fodowefan hawula. 437. ГIелмуялълъ лълъалъачIого, гIакълуялда тIегь балареб. felmuya: :a;azogo, faqluyalda Teh balareb. 438. ГIелмуялълъе къадаравгIан гIалимчияссул нух къваридаб. felmuya:e qadarawfan falimxiyaSul nu[ qwaridab. 439. ГIелмуялълъул бетIер – гIакълу, гIакълуялълъул бетIер – ссабру, ссабруялълъул бетIер – пикру. felmuya:ul beTer - faqlu, faqluya:ul beTer - Sabru, Sabruya:ul beTer - _ikru. Цо гIолилав ун вукIаравила рикIкIадаб улкаялде цIцIализе. ЦIцIалун вачIунаго, щваравила цо херав чияссда асскIове. cu folilaw un wujarawila riJadab ulkayalde ~ali#e. ~alun wazunago, &warawila co [eraw xiyaSda aSjowe. Гьикъарабила херав чиясс. hiqarabila [eraw xiyaS. - ГIелму щварабищ, гьудул? - felmu &warabi&, hudul? - Щвана, цIцIалун вахъана. - &wana, ~alun wa]ana. - ГIелмуялълъул бетIер щибхха? felmuya:ul beTer &ib{a? - Лъаларо. - ;alaro. - Лъалареб батани, – ян абун буго херасс, – мун дагьавги цIцIализе ккелахха. - ;alareb batabi, - yan abun bugo [eraS, - mun dahawgi ~ali#e Kela{a. Нахъвуссун вуго. Гьанжесса жиндирго устарассдассан гьассда лъан буго гIелмуялълъул бетIер щибали. na]wuSun wugo. han$eSa $indirgo ustaraSdaSan haSda ;an bugo felmuya:ul beTer &ibali. ГIолилав гьанжеги вачIун вуго кIудияв чияссухъе. folilaw han$egi wazun wugo judiyaw xiyaSu]e. - Щиб ккараб? Лъарабищ гIелмуялълъул бетIер щибали? – ян гьикъун буго кIудияв чиясс. - &ib Karab? ;alabi& felmuya:ul beTer &ibali? - yan hiqun bugo judiyaw xiyaS. - ГIелмуялълъул бетIер гIакълу буго, – ян жаваб кьун буго гIолиласс. - felmuya:ul beTer faqlu bugo, - yan $awab pun bugo folilaS. - БитIун буго. Элълъулги бетIер щибхха? – ян гьикъун буго херасс. - biTun bugo. e:ulgi beTer &ib{a? - yan hiqun bugo [eraS. Лъаларилан жаваб кьун буго гIолиласс. ;alarilan $awab pun bugo folilaS. КIудияв чиясс гIолохъанчи нахъвуссинавун вуго. «ГIелмуялълъул бетIер гIакълу, гIакълуялълъул бетIер ссабру, ссабруялълъул бетIер пикру буго», – ян жаваб кьезегIан. judiyaw xiyaS folo]anxi na]wuSinawun wugo. «felmuya:ul beTer faqlu, faqluya:ul beTer Sabru, Sabruya:ul beTer _ikru bugo», - yan $awab pe#efan. 440. ГIемер бихьани, гIемер лъалеб, гIемер цIцIалани, дагьабги цIцIикIкIун лъалеб. femer bi%ani, femer ;aleb, femer ~alani, dahabgi ~iJun ;aleb. 441. ГIемер бицани цого жо чIалгIунеб, гIемер чIамуни ссакъисс бутIунеб. femer bicani cogo $o zalfuneb, femer zamuni SaqiS buTuneb. 442. ГIемер букIине ккани, гIемер хIалтIизеги кколев. femer bujine Kani, femer \alTi#egi Kolew. 443. ГIемер вачIани, гьобол чIалгIуна, гIемер чIамуни, ссакъисс бутIуна. femer wazani hobol zalfuna, femer zamuni SaqiS buTuna. 444. ГIемер велъани, велъаравгIан гIодизеги ккола. femer we;ani, we;arawfan fodi#egi Kola. 445. ГIемер гаргади гIарац батани, гаргадичIого чIчIей месед буго. femer fargadi farac batani, gargadizogo Zey mesed bugo. 446. ГIемер гаргадулел Аллагьассеги рокьуларел. femer gargadulel allahaSegi ropularel. 447. ГIемер гьеданищ – гьеб буго гьересси. femer hedani& - heb bugo hereSi. 448. ГIемер гьедарулесс гIемер гьерссал рицунел. femer hedaruleS femer herSal ricunel. 449. ГIемер гIодой къуларай балъго хъахIба ятула, кIал чалуххай чидар яс черхх цIунарай ятула. femer fodoy qularay ba;go ]a\ba yatula, jal xalu{ay xidar yas xer{ `unaray yatula. 450. ГIемер гIорцIцIизабуни катицца гIункIкI кколареб, цIакъго гогьдаризаруни лъималаз дунял гьабулареб. femer for~i#abuni katiCa funJ Kolareb, `aqgo gohdari#aruni ;imala# dunyal habulareb. 451. ГIемер жо лъанилан гIакъил вахъунарев. femer $o ;anilan faqil wa]unarew. 452. ГIемер кванани, гьоцIцIоги кьогIлъулеб. femer kwanani, ho~ogi pof;uleb. 453. ГIемер кванани кванил тIагIам хола, гIемер бицани рагIул магIна хола. femer kwanani kwanil Tafam [ola, femer bicani raful mafna [ola. 454. ГIемер кванани чехь унтулеб, гIемер гаргадани бетIер унтулеб. femer kwanani xe% untuleb, femer gargadani beTer untuleb. 455. ГIемер кванарассул квандасса хьул буссуна, гIемер гаргадулессдасса гIадамазул ракI буссуна. femer kwanaraSul kwandaSa %ul buSuna, femer gargaduleSdaSa fadama#ul raj buSuna. 456. ГIемер кванаялълъ кечI ахIиларо. femer kwanaya: kez a\ilaro. 457. ГIемер квер – кьарияб, цо квер – хIалакъаб. femer kwer - pariyab, co kwer - \alaqab. 458. ГIемер къвакъвадулеб къурщицца хоно гьабуларебила. femer qwaqwaduleb qur&iCa [ono habularebila. 459. ГIемер къвакъвадулелълъул ханал дагьал рукIуна. femer qwaqwadule:ul [anal dahal rujuna. 460. ГIемер кьвагьуге, ишан ккун кьвагье. femer pwahuge, i^an Kun pwahe. 461. ГIемер кIалъай гIарац батани, кIалъачIого чIчIей меседила. femer ja;ay farac batani, ja;azogo Zey mesedila. 462. ГIемер кIалъалессул хIалтIи дагьаб. femer ja;aleSul \alTi dahab. 463. ГIемер лълъадахъани, гIеретI бекула. femer :ada]ani, fereT bekula. 464. ГIемер лъай, дагь кIалъай. femer ;ay, dah ja;ay. 465. ГIемер лIухьун рукъ бацIцIалъулареб, рацIцIалъи цIунулеб гьечIони, гIемер чурун ретIел бацIцIалъулареб, бацIцIад цIунизе лъачIони. femer /u%un ruq ba~a;ulareb, ra~a;i `unuleb hezoni, femer xurun reTel ba~a;ulareb, ba~ad `uni#e ;azoni. 466. ГIемер мехх барассда гуребила лъалеб, гIемер бихьарассдайила. femer me{ baraSda gurebila ;aleb, femer bi%araSdayila. 467. ГIемер мехх барассда гIемераб лъалеб (дудасса цо къоялълъ кIудияссул цо къоялълъул гIакълу цIцIикIкIун букIунеб). femer me{ baraSda femerab ;aleb (dudaSa co qoya: judiyaSul co qoya:ul faqlu ~iJun bujuneb). 468. ГIемер мехх барассда гIемер лъала, дуниял бихьарассда дагьабги цIцIикIкIун лъала. femer me{ baraSda femer ;ala, duniyal bi%araSda dahabgi ~iJun ;ala. 469. ГIемер меххалълъ чIчIараб жоги – хIама, чIчIечIого вилълъаравги – гIабдал. femer me{a: Zarab $ogi - \ama, Zezogo wi:arawgi - fabdal. 470. ГIемер тIад тенкани, ганчIидаги гвенд лIугьуна. femer Tad tenkani, ganzidagi gwend /uhuna. 471. ГIемер чIчIейги цIцIар гуро, чIчIечIого вилълъинги рецц гуро. femer Zeygi ~ar guro, Zezogo wi:ingi reC guro. 472. ГIемераб беццараб роццаххун уна. femerab beCarab roCa{un una. 473. ГIемераб бокьарассе дагьабгицин щоларо. femerab boparaSe dahabgicin &olaro. 474. ГIемераб гIазу – гIемераб тIорщел. femerab fa#u - femerab Tor&el. 475. ГIемераб – гIорцIцIизегIан, дагьаб – тIагIинегIан. femerab - for~i#efan, dahab - Tafinefan. 476. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикIго лъай лълъикIабила. femerab $o kwe^go ;ayaldaSa conigi $o :ijgo ;ay :ijila. Цо къоялълъ хъаз къуркъбузул хIорихъе бачIун буго. Жидерго хIорде хъаз бачIин къуркъбузе рекIее гIун гьечIо. КIиялго къаццандизе, цоцазде рогьрал разе лIугьун руго. Хъаз чIухIун кIалъан буго - «Дида лълъедезеги лъала, ракъдассан билълъинеги лъала, гьаваялдассан боржинеги кIола…» co qoya: ]a# qurqbu#ul \ori]e bazun bugo. $idergo \orde ]a# bazin qurqbu#e rejeye fun hezo. jiyalgo qaCandi#e, coca#de rohral ra#e /uhun rugo. ]a# zu\un ja;an bugo - «dida :ede#egi ;ala, raqdaSan bi:inegi ;ala, hawayaldaSan bor$inegi jola...» Гьелълъ бицунебги гьоркьоб къотIизабун, цо къверкъалълъ гьелълъие жаваб кьун буго - «Дуда чан жо лъалеб батаниги, цонигияб рагIа-ракьанде щун лъаларо. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикI лъай лълъикIаб буго» he: bicunebgi horpob qoTi#abun, co qwerqa: he:iye $awab pun bugo - «duda xan $o ;aleb batanigi, conigiyab rafa-rapande &un ;alaro. femerab $o kwe^ ;ayaldaSa conigi $o :ij ;ay :ijab bugo» 477. ГIемераб зигардиялдасса дагьаб жигар лълъикIаб. femerab #igardiyaldaSa dahab $igar :ijab. 478. ГIемераб кванани, гьоцIцIоги загьрулъулебила. femerab kwanani, ho~ogi #ahru;ulebila. 479. ГIемераб рахIаталдасса рагIулареб хIалтIи лълъикIаб. femerab ra\ataldaSa rafulareb \alTu :ijab. 480. ГIемераб рокъоб лълъикIаб, рекъараб ургьиб лълъикIаб. femerab roqob :ijab, reqarab urhib :ijab. 481. ГIемераб цIцIад бани ххер лълъикI бижула, гIемер кIалъанани калам хола. femerab ~ad bani {er :ij bi$ula, femer ja;anani kalam [ola. 482. ГIемер бицардана – дагьаб бичIчIана. femer bicardana - dahab biZana. 483. ГIемерав бицардани, гIемерав мекъи ккола. femeraw bicardani, femeraw meqi Kola. 486. ГIемерав вегиялълъ габур гьетIарав, гIемерав кьижиялълъ рукьби унтарав. femeraw wegiya: gabur heTaraw, femeraw pi$iya: rupbi untaraw. 487. ГIемерал санал рарассда гуребила лъалеб, гIемераб бихьарассдайила. femeral sanal raraSda gurebila ;aleb, femerab bi%araSdayila. 488. ГIемерги гаргадуге, мунго гIантав гьечIолъиги лъазабичIогоги тоге. femergi gargaduge, mungo fantaw hezo;igi ;a#abizogogi toge. 489. ГIемерго бакъваги гьабуге, бакъалда балеб хIалалълъ лълъамаги гьабуге. femergo baqwagi habuge, baqalda baleb \ala: :amagi habuge. 490. ГIемерго веццулев вугони, гьелда нахъа бугеб гъвацилги хIисаб гьабейила. femergo weCulew wugoni, helda na]a bugeb vwacilgi \isab habeyila. 491. ГIемерго къвакъвадани, цо балагьалде ккола. femergo qwaqwadani, co balahalde Kola. 492. ГIемерго къвакIани, къвакIан бекула. femergo qwajani, qwajan bekula. 493. ГIемерго къваригIани, къатIраги щолареб. femergo qwarifani, qaTragi &olareb. 494. ГIемерго нечарав бихьинчиги лълъикIав вукIунарев, нич бахъарай чIчIужугIаданги лълъикIай йикIунарей. femergo nexaraw bi%inxigi :ijaw wujunarew, nix ba]aray Zu$ufadangi :ijay yijunarey. 495. ГIемерго пударун, бакъул ххинлъи хвезабуге. femergo _udari, baqul {in;i [we#abuge. 496. ГIемерго сихIирлъиги хIалихьалъийила. femergo si\ir;igi \ali%a;iyila. 497. ГIемерго ххиралъиялълъ катицца тIинчI кванарабила. femergo {ira;iya: katiCa Tinz kwanarabila. 498. ГIемерго хIалимлъиги хIалихьалъийила. femergo \alim;igi \ali%a;iyila. 499. ГIемериссеб балагь – мацIцIалълъул балагь. femeriSeb balah - ma~a:ul balah. 500. ГIемериссел мунагьал мацIцIалдалъун рукIунел. femeriSel munahal ma~alda;un rujunel. 501. ГIемерлъани меседилги къимат холебила. femer;ani mesedilgi qimat [olebila. 502. ГIенеккулезухъ балагьун бице, бицаралълъухъ балагьун борце. feneKule#u] balahun bice, bicara:u] balahun borce. 503. ГIенеккун чIчIейги жавабила. feneKun Zeygi $awabila. 504. ГIергIедулеб басиялълъ рохьдой хIалхьи толаро, кIалдисса хъачIав чиясс жамагIатги квегъула. ferfeduleb basiya: ro%doy \al%i tolaro, jaldiSa ]azaw xiyaS $amafatgi kwevula. 505. ГIерещмухIумил гьобо гIадин ссвакан бугила. fere&mu\umil hobo fadin Swakan bugila. 506. ГIетI баккичIеб бетIер батIаргьиналълъ къазе кколеб. feT baKizeb beTer baTarhina: qa#e Koleb. 507. ГIетI баккулел кверазда нах бахинчIого ххутIулареб. feT baKulel kwera#da na[ ba[inzogo {uTuleb. 508. ГIетIуцца ссвак бахъулеб, ссапнацца гъиз бахъулеб. feTuCa Swak ba]uleb, Sa_naCa vi# ba]uleb. 509. ГIечугъотIодасса цIулакьо чIвалареб. fexuvoTodaSa `ulapo zwalareb. 510. ГIеч квани – гага, гени квани – гIоркь. fex kwani - gaga, geni kwani - forp. 511. ГIечудасса Хважа гIадин вуссанила. fexudaSa [wa$a fadin wuSanila. 512. ГIи бугев чийилан, чияссе ратIа кьечIев, чанаве ун, чияда маза гьанал бихьичIев. fi bugew xiyilan, xiyaSe raTa pezew, xanawe un, xiyada ma#a hanal bi%izew. 513. ГIи бугони – чаландар, чу бугони – багьадур. fi bugoni - xalandar, xu bugoni - bahadur. 514. ГIи гьабилалде гIиял хьон гьабе (ГIиял хьон – ххер, ххарил хьон – беэнлъи). fi habilalde fiyal %on (fiyal %on - {er, {aril %on - been;i). 515. ГIи гьечIеб бечелъиги бечелъи гуро, тIеренаб хьвацIцIил чаранлъиги чаранлъи гуро. fi hezeb bexe;igi bexe;i guro, Terenab %wa~il xaran;igi xaran;i guro. 516. ГIи гьечIессул гьан дагьаб, хIама гьечIессул цIул дагьаб. fi hezeSul han dahab, \ama hezeSul `ul dahab. 517. ГIи кьаралъи – вехьассул гьунар, гIака кьаралъи – чIчIужуялълъул гьунар. fi para;i - we%aSul hunar, faka para;i - Zu$uya:ul hunar. 518. ГIи мискинасс хьихьулеб, гьан бечедасс кваналеб. fi miskinaS %i%uleb, han bexedaS kwanaleb. 519. ГIи тIуридалила гIангис тIурулеб (Радал гIи тIурулеб, гIангис къаденахъе тIурулеб). fi Turidalila fangis Turuleb (radal fi Turuleb, fangis qadena]e Turuleb). 520. ГIи хьихьичIесс хьолбол гьан кунареб. fi %i%izeS %olbol han kunareb. 521. ГIи цIунизе бацI тоге, яс цIунизе вас тоге. fi `uni#e ba` toge, yas `uni#e was toge. 522. ГIи цIунизе бацI тарав. fi `uni#e ba` taraw. 523. ГIи чохьоцца гъурула, базар гъараялълъ уна, на гьороцца босула, гьабал ихицца уна. Хур босе! Хур босе! (Гьидерил кици). fi xo%oCa vurula, ba#ar varaya: una, na horoCa bosula, habal i[iCa una. [ur bose! [ur bose! (hideril kici). 524. ГIибрат босун хIалтIарав хIалтIулI нахъа кколаро, гIумруялълъул нух лъарав нахъа пашманлъуларо. fibrat bosun \alTaraw \alTu/ na]a Kolaro, fumruya:ul nu[ ;araw na]a _a^man;ularo. 525. ГIигIлу – гIадамассул, къадар – Аллагьассул. fiflu - fadamaSul, qadar - allahaSul. 526. ГIила гьечIеб жо гьечIеб, гIайиб гьечIев чи гьечIев. fila hezeb $o hezeb, fayib hezew xi hezew. 527. ГIила гьечIого барщарав, мухь кьечIого рекъолевила. fila hezogo bar&araw, mu% pezogo reqolewila. 528. ГIила гьечIого гIемер велъулев чи – черххалълъул цо чIил камурав чи. fila hezogo femer we;ulew xi - xer{a:ul co zil kamuraw xi. 529. ГIин тIаме, битIаралда гурони божуге. fin Tame, biTaralda guroni bo$uge. 530. ГIин цIуне къваригIел гьечIеб рагIиялдасса, бер цIуне къваригIел гьечIеб жоялдасса (къваригIел гьечIеб рагIугеги, ссурукъаб бихьугеги). fin `une qwarifel hezeb rafiyaldaSa, ber `une qwarifel hezeb $oyaldaSa (qwarifel hezeb rafugegi, Suruqab bi%ugegi). 531. ГIиналдасса бер ццебессеб. finaldaSa ber CebeSeb. 532. ГIинкъав беццассда баххиллъулевила, беццав гIинкъассда баххиллъулевила. finqaw beCaSda ba{il;ulewila, beCaw finqaSda ba{il;ulewila. 533. ГIинкъав нечоларев, беццав хIинкъуларев. finqaw nexolarew, beCaw \inqularew. 534. ГIинкъав чияссе кIицIцIул как ахIулареб. finqaw xiyaSe ji~ul kak a\ulareb. 535. ГIинкъай бахIарай гIадин. finqay ba\aray fadin. БахIаралда рагIулеб букIун гьечIо асскIор ругез бицунеб жо. Гьелълъ асскIой йигей гьудулалада гьарун буго, цогидал релъулеб меххалълъ, жиндаги тункейилан. Гьудул, цо рахъалде юссунаго, бахIаралда дагьайго хъван йиго, бахIаралълъги гьабун буго цо кIудияб релъи. ba\aralda rafulareb bujun hezo aSjor ruge# bicuneb $o. he: aSjoy yigey hudulalda harun bugo, cogidal re;uleb me{a:, $indagi tunkeyila. hudul, co ra]alde yuSunago, ba\aralda dahaygo ]wan yigo, ba\ara:gi habun bugo co judiyab re;i. 536. ГIинкъаллъун жанире айила, беццаллъун къватIире лIугьайила. finqal;un $anire ayila, beCal;un qwaTire /uhayila. 537. ГIинкъассда вихьизе чIчIоге, беццассухъе кквезе чIчIоге. finqaSda wi%i#e Zoge, beCaSu]e Kwe#e Zoge. 538. ГIинкъассда щуруге, беццассде къинкIуге. finqaSda &uruge, beCaSde qinjuge. 539. ГIинтIи квараб меххалълъ буртIал гIадин. finTi kwarab me{a: burTal fadin. 540. ГIинтIи кварасс бакI-бакI хъассизе кколебила, ургъичIого кIалъарасс бакI-бакIги бетIерги хъассизе кколебила. finTi kwaraS baj-baj ]aSi#e Kolebila, urvizigo ja;araS baj-bajgi beTergi ]aSi#e Kolebila. 541. ГIинтIизе ццевеги кIанцIуге, речIчIизе нахъаги чIчIоге. finTi#e Cewegi jan`uge, reZi#e na]agi Zoge. 542. ГIисси-бикъинал накIкIал бакъуцца кунел, дагьа-макъаб унти кваницца унеб. fiSi-biqinal naJal baquCa kunel, daha-maqab unti kwaniCa uneb. 543. ГIиссинал чIинххазулги кIудияб гохI лIугьунеб. fiCinal zin{a#ulgi judiyab go\ /uhuneb. 544. ГIиссинккун тIинкIулебги лълъим лъарахъе щолебила. fiCinKun Tinjulebila :im ;ara]e &olebila. 545. ГIиссинлъималазул лъелав ццевехъан. fiCin;imala#ul ;elaw Cewe]an. 546. ГIишкъуе чIалгIен гьечIеб, балаялълъе ссвак гьечIеб. fi^quye zalfen hezeb, balaya:e Swak hezeb. 547. ГIиядеги инаро, чуриги чIчIикIиларо. fiyadegi inaro, xurigi Zijilaro. 548. ГIияе бокьухъе бацI хвеларо. fiyaye bopu]e ba` [welaro. 549. ГIи къинлъиялдаги хурул хьоналдаги ххадув чи гъоларев. fi qin;iyaldagi [urul %onaldagi {aduw xi volarew. 550. ГIиял рехъеналълъе цо бацIги гIемераб. fiyal re]ena:e co ba`gi femerab. 551. ГIиялI цIцIелъуналдасса цIцIаналI дегIенлъунго лълъикI. fiya/ ~e;unaldaSa ~ana/ defen;ungo :ij. 552. ГIодизе ккедал – йоххарай, йоххизе ккедал – гIодарай. fodi#e Kedal - yo{aray, yo{i#e Kedal - fodaray. 553. ГIодичIони лъимадуе керен кьолареб. fodizoni ;imaduye keren polareb. 554. ГIодоб батани катан кьолев, куй къинлъани кьегIер кьолев. fodob batani katan polew, kuy qin;ani pefer polew. 555. ГIодоб лъезе тIину гуреб, кодобе босизе гIоркь гуреб. fodob ;e#e Tinu gureb, kodobe bosi#e forp gureb. 556. ГIодоб ракь босарасс тIад битIун зобги босулеб. fodob rap bosaraS Tad biTun #obgi bosuleb. 557. ГIодоб – турут, таххида – маххмар. fodob - turut, ta{ida - ma{mar. 558. ГIодобакI – бечедаб жо. fodobaj - bexedab $o. 559. ГIодобе биччараб накIкIил кьерхен ххалатаб. fodobe biXarab naJil per[en {alatab. 560. ГIодобе реххараб жоялълъе кодобе босулев чи камуларевила. fodobe re{arab $oya:e kodobe bosulew xi kamularewila. 561. ГIодобе реххуге, гIодосса босе. fodobe re{uge, fodoSa bose. 562. ГIодобе туни – мегеж, эххеде туни – михъал. fodobe tuni - mege$, e{ede tuni - mi]al. 563. ГIодобе тIураб лълъим тIад буссунареб. fodobe Turab :im Tad buSunareb. 564. ГIодов – гIадатав, чотIа – аздагьо (ХIажимурадил хIакъалълъулI). fodow - fadataw, xoTa - a#daho (\a$imuradil \aqa:u/). 565. ГIодов чIчIолелълъул къулиялълъухъ ралагье, тIаде вахъунелълъул ворххиялълъухъ ралагье. fodow Zole:ul quliya:u] ralahe, Tade wa]une:ul wor{iya:u] ralahe. 566. ГIодов чIчIун вукIинегIан чIобого хIалтIулев вукIинги лълъикIаб. fodow Zun wujinefan zobogo \alTulew wujingi :ijab. 567. ГIодове валагьичIого векерарассул квергIаги гIодоб чIвала. fodowe walahizogo wekeraraSul kwerfagi fodob zwala. 568. ГIодове виччан вилълъа, унелълъуве щвезе, ххеххлъичIого кIалъай, мекъсса ккунгутIизе. fodowe wiXan wi:a, une:uwe &we#e, {e{;izogo ja;ay, meqSa KunguTi#e. 569. ГIодове виччан вилълъарасс нух гIемер толеб. fodowe wiXan wi:araS nu[ femer toleb. 570. ГIодой йикIун тIала гурей, тIаде яхъун мерго гурей. fodoy yijun Tala gurey, Tade ya]un mergo gurey. 571. ГIодой чIчIани квенчIчIел цIурай, тIаде яхъани бащдаб щущарай. fodoy Zani kwenZel `uray, Tade ya]ani ba&dab &u&aray. 572. ГIодор ккун, тIаде рахъунила кIудиял гIолел, гъалатIал гьарулагойила гIакълуялде щолел. fodor Kun Tade ra]unila judiyal folel, valaTal harulagoyila faqluyalde &olel. 573. ГIодорчIчIей хIалхьияб жо бугоанила, гIодор чIчIарабгIан меххалълъ рахъун чIчIезе кколарелани. fodorZey \al%iyab $o bugoanila, fodor Zarabfan me{a: ra]un Ze#e Kolarelani. 574. ГIодоре риччан гьабураб хIалтIи лIугIулеб, цо хIохьолI, цо каралълъ чIван гьабураб ххутIулеб. fodore riXan haburab \alTi /ufuleb, co \o%o/, co kara: zwan haburab {uTuleb. 574. ГIодосса кибего унарин, цин туртидасса кванаян абулебила бакъалда бараб ролI кваназе рачIарал тIанчIазда къадкицца. fodoSa kibego unarin, cin turtidaSa kwanayan abulebila baqalda barab ro/ kwana#e razaral Tanza#da qadkiCa. 576. ГIодоссан зваргъи рагIарав, зодоссан дваргъи рагIарав. fodoSan #warvi rafaraw, #odoSan dwarvi rafaraw. 577. ГIодоссан регьел кьун тIегь баккуларо, тIассан бакъуццаги ххинлъи кьечIони. fodoSan rehel pun Teh baKularo, TaSan baquCagi {in;i pezoni. 578. ГIодулаго аниги ине ккола Гула гвандинибе, квен босун гIагIадулаго аниги ине ккола. fodulago anigi ine Kola gula gwandinibe, kwen bosun fafadulago anigi ine Kola. ХIажимурад гIурусазул рахъалде араб меххалълъ Шамилицца гьессул хъизан тусснахъалда жаний тIамун йиго. КIодоэбелалълъ ХIажимурадил гьитIинав вас Гула гвандинир тIамуразе квен босун витIулев вукIун вуго. Гула гьениве унаго цин гIодулев вукIун вуго, нахъеги жинццаго жиндиего гьадаб кицилъун ккараб гIакълуги кьун вуцIцIунев вукIун вуго. Жакъа гьаб кици хIалтIизабула, бокьаниги бокьичIониги, тIадаб иш тIубазабизе кколилан абураб магIнаялда. \a$imurad furusa#ul ra]alde arab me{a: ^amiliCa heSul ]i#an tuSna]alda $aniy Tamun yigo. jodoebela: \a$imuradil hiTinaw wac gula gwandinir Tamura#e kwen bosun wiTulew wujun wugo. gula heniwe unago cin fodulew wujun wugo, na]egi $inCago $indiyego hadab kici;un Karab faqlugi pun wu~unew wujun wugo. $aqa hab kici \alTi#abula, bopanigi bopizonigi, Tadab i^ Tuba#abi#e Kolilan aburab mafnayalda. 579. ГIодулареб бералдассаги цIунаги, гIорцIцIулареб чехьалдассаги цIунаги. fodulareb beraldaSagi `unagi, for~ulareb xe%aldaSagi `unagi. 580. ГIодун бахъараб хъала бихьичIо, гьардон щвараб гьунар бихьичIо. fodun ba]arab ]ala bi%izo, hardon &warab hunar bi%izo. 581. ГIодун - руцIцIунила лъимал гIолел. fodun - ru~unila ;imal folel. 582. ГIолохъанаб меххалълъ хIамаги берцинаб. folo]anab me{a: \amagi bercinab. 583. ГIолохъанго бахъинчIони чодул нухда хIур херлъараб меххалълъ бахъунаребила. folo]ango ba]inzoni xodul nu[da \ur [er;arab me{a: ba]unarebila. 584. ГIолохъанлъи мудалълъ кьолеб букIараб батани, херлъи ссахIицца кьолеб буго. folo]an;i muda: poleb bujarab batani, [er;i Sa\iCa poleb bugo. 585. ГIолохъанлъиялълъул рахIат босарав херлъидал зигардулев. folo]an;iya:ul ra\at bosaraw [er;idal #igardulew. 586. ГIолохъанлъуда лъачIеб рокьи щай, вакъидал щвечIеб квен щай? folo]an;uda ;azeb ropi &ay, waqidal &wezeb kwen &ay? 587. ГIолохъанчи диццаги рехханин, херав чиясс дунги рехханилан абурабила нухалълъ. folo]an;i diCagi re{anin, [eraw xiyaS dungi re{anilan aburabila nu[a:. 588. ГIолохъанчи нухалълъ чIвалевила, херав чиясс нух чIвалебила. folo]anxi nu[a: zwalewila, [eraw xiyaS nu[ zwalebila. 589. ГIолохъанчияссул кутак бергьараб, херав чияссул маххщел бергьараб. folo]anxiyaSul kutak berharab, [eraw xiyaSul ma{&el berharab. 590. ГIолохъанчияссул ракI – заз гIадаб жо. folo]anxiyaSul raj - #a# fadab $o. 591. ГIондокь кьиндал хисулеб, кьерагъо къойил хисулеб. fondop pindal [isuleb, peravo qoyil [isuleb. 592. ГIонкIкIода данде кетолъун вукIа, бацIида данде гъалбацIлъун вукIа. fonJoda dande keto;un wuja, ba`ida dande valba`;un wuja. 593. ГIонкIкIодассан ккараб тIинчIалълъ къвачIа букъичIого толареб. fonJodaSan Karab Tinza: qwaza buqizogo tolareb. 594. ГIонкIкIое кетоги гъалбацIила. fonJoye ketogi valba`ila. 595. ГIонкIкIол кето гьабуге, катил гъалбацI гьабуге. fonJol keto habuge, katil valba` habuge. 596. ГIонкIкIотIинчIалълъ къвачIа букъула, хъурмил тIинчIалълъ кьегIер чIвала. fonJoTinza: qwaza buqula, ]urmil Tinza: pefer zwala. 597. ГIонкIкIолаб гьабурассе катилаб гьабе. fonJolab haburaSe katilab habe. 598. ГIонкIкIолги букIунеб жиндаго рекъараб цIуна-къай, гIанххрилги букIунеб жиндаго рекъараб рукъалълъул низам. fonJolgi bujuneb $indago reqarab `una-qay, fan{rilgi bujuneb $indago reqarab ruqa:ul ni#am. 599. ГIонкIкIоцца букъун къвачIа тIагIинаро. fonJoCa buqun qwaza Tafinaro. 600. ГIонкIкIоцца инкар ккун кето чIчIоларо, квегIенлъи ккарабго тIад речIчIичIого. fonJoCa inkar Kun keto Zolaro, kwefen;i Karabgo Tad reZizogo. 601. ГIор бахун ххадуб кьо щай? for ba[un {adub po &ay? 602. ГIор бахунеб меххалълъ гурони, чIчIегIерабги хъахIабги нахъияб рахъ лъалареб. for ba[uneb me{a: guroni, Zeferabgi ]a\abgi na]iyab ra] ;alareb. 603. ГIор кьодухъе буссуна, чу кьолокье буссуна. for podu]e buSuna, xu polope buSuna. 604. ГIор кIодолъизейилан кIващ биччалареб. for jodo;i#eyilan jwa& biXalareb. 605. ГIор ххалалъухъе кьо балареб. for {ala;u]e po balareb. 606. ГIор щун букIаго, цIул бахъе. for &un bujago, `ul ba]e. 607. ГIорал ралъдахъе уна, гьерссал гьороцца уна. foral ra;da]e una, herSal horoCa una. 608. ГIоралдасса хоно тIокIлъаниги, гIемерал ругилан эбел-инссуе лъимал тIокIлъуларел. foraldaSa [ono Toj;anigi, femeral rugilan ebel-inSuye ;imal Toj;ularel. 609. ГIоралълъ восун унесс хIотол нихьваялдеги квер ххапулеб. fora: wosun uneS \otol ni%wayaldegi kwer {a_uleb. 610. ГIорго бихьилалде хьитал рахъуге (гIорго бихьилалде хьитал рахъарай). forgo bi%ilalde %ital ra]uge (forgo bi%ilalde %ital ra]aray). 611. ГIоркь-рачIчI гьечIеб рагIи бицун, мунго учуз гьавуге, дурго гIайибалги раххчун, чиядеги бугъуге. forp-raZ hezeb rafi bicun, mungo uxu# hawuge, durgo fayibalgi ra{xun, xiyadegi buvuge. 612. ГIоркь-рачIчI гьечIел рагIаби гIадамалълъе росуге. forp-raZ hezel rafabi fadama:e rosuge. 613. ГIоркьилав рокъов цIакъав, бахIарчи кьалда цIакъав. forpilaw roqow `aqaw, ba\arxi palda `aqaw. 614. ГIорхъолIа борчIараб бечелъи – баччизе захIматаб гьир. for]o/a borzarab bexe;i - baXi#e #a\matab hir. 615. ГIорцIцIараб къоялълъ михъал кIичIун, нахъиссеб къоялълъ михъал далун, нахърател букIунареб. for~arab qoya: mi]al jizun, na]iSeb qoya: mi]al dalun, na]ratel bujunareb. 616. ГIорцIцIараб рокъоб бакъараб кето. for~arab roqob baqarab keto. 617. ГIорцIцIарав гIеркъолевила, вакъарав семулевила. for~araw ferqolewila, waqaraw semulewila. 618. ГIорцIцIаразул ракI гъезе годекIанире унге. for~ara#ul raj ve#e godejanire unge. 619. ГIорцIцIарал бубудула, ракъарал мимидула. for~aral bubudula, raqaral mimidula. 620. ГIорцIцIарассда вакъарав лъаларев, ххинлъарассда вугьарав лъаларев. for~araSda waqaraw ;alarew, {in;araSda wuharaw ;alarew. 621. ГIорцIцIарассеялдасса вакъарассе кумек гьабизе бигьаябила. for~araSeyaldaSa waqaraSe kumek habi#e bihabila. 622. ГIорцIцIиялълъул макруялдассаги цIунаги, ракъиялълъул балагьалдассаги цIунаги. for~iya:ul makruyaldaSagi `unagi, raqiya:ul balahaldaSagi `unagi. 623. ГIорцIмада эмен цIеххедал, эбел гIала кколилан абурабила. for`mada emen `e{edal, ebel fala Kolilan aburabila. 624. ГIорцIцIул балагь ракъул балагьалдасса кIудияб. for~ul balah raqul balahaldaSa judiyab. 625. ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан бакъун эркенлъиялдаго лълъикIила. for~un lav;iyalda bujinefan baqun erken;iyalda :ijila. Кваназе жо балагьизе бачIунеб бацIида гьой данделъанила. - Дур кьаралъиго щиб? ЛълъиццагIаги мун гьеб хIалалълъ хьихьулеб? – ан гьикъанила бацIицца. - Рукъ-бакI цIунаралълъухъ бетIергьанасс хьихьула, – ян абунила гьойцца. Жинццаги цIунилаанин рукъ-бакI, кваназе жо кьолеб батаниян абунила бацIицца. Разилъанила гьой бацI росулIе бачине. Гьой ццебе-ццебе букIанила, бацI ххадуб букIанила. БацIицца гьойда гьикъанила гьеб дур габуралълъе лIугьараб жо щибилан. Раххссицца хIулизабун бугилан абунила гьойцца. - Гьедин батани, билълъинаро дун дуда цадахъ! ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан, бакъун эркенлъиялдаго бокьила! Гьединги абун, бацI рохьобеххун балагьун анила. kwana#e $o balahi#e bazuneb ba`ida hoy dande;anila. - dur para;igo &ib? :iCafagi mun heb \ala: %i%uleb? - an hiqanila ba`iCa. - ruq-baj `unara:u] beTerhanaS %i%ula, - yan abunila hoyCa. $inCagi `unilaanin ruq-baj, kwana#e $o poleb bataniyan abunila ba`iCa. ra#i;anila hoy ba` rosu/e baxine. hoy Cebe-Cebe bujanila, ba` {adub bujanila. ba`iCa hoyda hiqanila heb dur gabura:e /uharab $o &ibilan. ra{SiCa \uli#abun bugilan abunila hoyCa. - hedin batani, bi:inaro dun duda cada]! for~un lav;iyalda bujinefan, baqun erken;iyalda bopila. hedingi abun, ba` ro%obe{un balahun anila. 626. ГIорцIцIун ххадуб квараб – шайтIаналълъейила. for~un {adub kwarab - ^ayTana:eyila. 627. ГIочIотIа чIван, чIалитIа ххун. fozoTa zwan, zaliTa {un. 628. ГIощтIода рекъарабила гIоркьги букIунеб. fo&Toda reqarabila forpgi bujuneb. 629. ГIощтIода ххадуб гIоркь реххуге. fo&Toda {adub forp re{uge. 630. ГIощтIое рохь гурев, рохьдое мегIер гурев. fo&Toye ro% gurew, ro%doye mefer gurew. 631. ГIощтIолгун кьал ахIун, гIоркьгун рекъоге. fo&Tolgun pal a\un, forpgun reqoge. 632. ГIужда квегъичIеб барти квегъуд буссунаро, гIужда хIалтIичIел кверал нахъа ругьунлъуларо. fu$da kwevizeb barti kwevud buSunaro, fu$da \alTizel kweral na]a ruhun;alaro. 633. ГIужда чIор гIабдалассухъаги щвезе бегьулеб. fu$da zor fabdalaSu]agi &we#e behuleb. 634. ГIужилав чанахъанассул гула алххунаро, гIакъилав чияссул рагIи гIодоб ххутIуларо. fu$ilaw xana]anaSul gula alqunaro, xiyaSul xiyaSul rafi fodob {uTularo. 635. ГIужрукъалълъ тIанчIазда абулебила, нуж бищунго хIеренал, хIули гIадал тамахал. fu$ruqa: Tanza#da abulebila, nu$ bi&ungo \erenal, \uli fadal tama[al. 636. ГIужрукъалълъул багьа цIакихъ кьоге, гIадамассе къимат ратIлихъ кьоге. fu$ruqa:ul baha `aki] poge, fadamaSe qimat raTli] poge. 637. ГIумру бугила гIурччинаб ххер гIадаб жо, балагьалдасса ххвассарлъаниги, ххарицелалдасса борчIулареб. fumru bugila furXinab {er fadab $o, balahaldaSa {waSar;anigi, {aricelaldaSa borzulareb. 638. ГIумру кьурасс хвелги кьолебила. fumru puraS [welgi polebila. 639. ГIумруги бихьарав, бихьанщинабги хIехьарассул гурони, чIара-хьараб гIамал-ххассият букIунареб. fumrugi bi%araw, bi%an&inabgi \e%araSul guroni, zara-%arab famal-{aSiyat bujunareb. 640. ГIумруги талихIила, хвелги талихIила. fumrugi tali\ila, [welgi tali\ila. 641. ГIумруялда рекъарабила хвел букIунеб. fumruyalda reqarabila [wel bujuneb. 642. ГIумруялълъул аххир къанда хIарщ речIчIидал лъала. fumruya:ul a{ir qanda \ar& reZidal ;ala. 643. ГIун бачIунеб гIелалълъ тараб цIцIали – гIун бачIунеб гъотIода бараб хIапаро. fun bazuneb fela: tarab ~ali - fun bazuneb voToda barab \a_aro. 644. ГIунараб катицца гIорчо кIудияб хъамулеб (ГIунараб катицца гьорчо кIудияб биччалеб). funarab katiCa forxo judiyab ]amuleb (funarab katiCa horxo judiyab biXaleb). 645. ГIунарассул лъорове вугьарав лIугьаравила. funaraSul ;orowe wuharaw /uharawila. 646. ГIундул рихьун – хIама, рачIчI бихьун – дегIен. fundul ri%un - \ama, raZ bi%un - defen. 647. ГIункIкI бечIчIулев, кIкIара чIунтIулев (ГIункIкIбечIчI, кIкIарачIунтI). funJ beZulew, Jara zunTulew (funJbeZ, JarazunT). 648. ГIункIкI кIурщунилан лъар хъублъулареб. funJ jur&unilan ;ar ]ub;ulareb. 649. ГIункIкIаз гIащтIи букъи – багьана. funJa# fa&Ti buqi - bahana. 650. ГIункIкI кквезегIан, кетоги беццуге, цер кквезегIан, бахIриги беццуге. funJ Kwe#efan, ketogi beCuge, cer Kwe#efan, ba\rigi beCuge. 651. ГIункIкI – цагъринибе, цер – авлахъалде. funJ - cavrinibe, cer - awla]alde. 652. ГIункIкIги кетоги рекъани, бакъал тукен ххараблъула. funJgi ketogi reqani, baqal tuken {arab;ula. 653. ГIурав васасс корол хIамул рухъулел. furaw wasaS korol \amul ru]ulel. 654. ГIурай яс гIодизе бачIараб бацIие кье. furay yas fodi#e bazarab ba`iye pe. 655. ГIурай яс рокъой йигони, нусалълъе рахIат толареб. furay yas roqoy yigoni, nusa:e ra\at tolareb. 656. ГIурай яцц рокъой йигони, ваццассда вегун макьу щолареб. furay yaC roqoy yigoni, waCaSda wegun mapu &olareb. 657. ГIурассдасса воххуларев, хварассухъ гIодуларев. furaSdaSa wo{ularew, [waraSu] fodularew. 658. ГIурда хIал гьабуге, хурда дагь гьабуге (ГIуру гIемер суге, хур дагьаб бекьун тоге). furda \al habuge, [urda dah habuge (furu femer suge, [ur dahab bepun toge). 659. ГIурул ханазул гьабун къед чIчIолареб. furul [ana#ul habun qed Zolareb. 660. ГIурул хъуй тIагIаниги, гьекъолдухъанассул рокъоб питна тIагIунареб. furul ]uy Tafanigi, heqoldu]anaSul roqob _itna Tafunareb. 661. ГIурул хIари гIуруцца уна, лъарал хIари лъарацца уна. furul \ari furuCa una, ;aral \ari ;araCa una. 662. ГIурул чваххи хисаниги, чияссул гIамал хисуларебила. furul xwa{i [isanigi, xiyaSul famal [isularebila. 663. ГIурулI вукIун лълъим щоларев, лъаргIив вукIун ххер щоларев. furu/ wujun :im &olarew, ;arfiw wujun {er &olarew. 664. ГIуруцца лъарал гьаракь къотIизарурал къоял рачIунгеги, къоязул сардал гьарурал сонал рачIунгеги. furuCa ;aral harap qoTi#arural qoyal razungegi, qoya#ul sardal harural sonal razungegi. 665. ГIурхъиги аххирги ссундулго букIунебила. fur]igi a{irgi Sundulgo bujunebila. 666. ГIурччингобарщ. furXingobar&. 667. ГIурччинлъи савуялълъ бухIула, гIадан рекIел гьаваялълъ вухIула. furXin;i sawuya: bu\ula, fadan rejel hawaya: wu\ula. 668. ГIусазда хIал букIаго бекейила гьоло. fusa#da \al bujago bekeyila holo. 669. ГIусал рикIунилан чехь гIорцIцIулареб. fusal rijunilan xe% for~ulareb. 670. ГIухьби гIемераб гIи бацIицца гъурулеб. fu%bi femerab fi ba`iCa vuruleb. 671. ГIухьби гIемерлъанагIан гIи дагьлъулеб. fu%bi femer;anafan fi dah;uleb.