top of page

Результаты поиска

1985 results found with an empty search

  • j | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Сс S Ссабру алжаналълъул кIулила. Ссабру гьабулеб бугилан чи валъаргъунге, си гIураб меххалълъ, биххулебин. Ссабру гьаби гIоларо, рекIелI гIакълу гьечIони. Ссабру гьабурассе пайда кIудияб. Ссабру гьечIев чияссул гьабун жо релълъунаро. Ссабру – гIакълуялълъул ххан. КIудияв чиясс васассул васассда малълъулеб букIун буго, ворехха, дир вас, мун ххеххдаруге, гIакълуялълъул ххан ссабруйин кколеб. ЧIчIужу ячун мехх бахъилалдего, гьев ккун вуго рагъде. Рокъове щвечIого, ун руго гIемерал санал. Гьасс пикру гьабулеб букIун буго чIчIужу жиндие ххияналъанадай, россассе анадайилан... Аххирги гьав щун вуго сардилI жиндирго минаялде. Цин рокъове лIугьиналде, тIохдеги вахун, ццебетIалаялдассан рокъове валагьараб меххалълъ, бихьун буго таххида вегун цо бихьинчи вукIинги, гьессул бетIералда кверги лъун, жиндирго чIчIужу йикIинги. КIудияв инссул малълъ босичIев ххеххдарухъанасс, жанивеги лIугьун, цин хханжар кьабун буго бихьинчияссда, ракIалда букIун буго чIчIужуги чIвазе. «Вай! ЧIвана гури дуцца дурго унтарав вас!» – ан чIчIужу тIад ххурххараб меххалълъ, бичIчIун буго гьессда ссабру гIакълуялълъул ххан букIин. Ссабру тIагIарассухъа тIад гьабун жо босуге. Ссабру ццебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе. Ссабруялда чIчIарассе пайда камулареб, ххеххдарухъанассул ххиялал хIорго ххутIулел. Ссабруялълъ мегIер лълъухъалеб. Ссабруялълъул тIиналда – багIараб месед. Ссабуралълъул аххада - роххел. Ссабруялълъул тIиналда тIогьол майдан рагIула. Ссабурассе – бохх, виххарассе – ратIа. Ссадакъа кье кваранаб квералълъ, кьураблъи квегIаб квералда лъаларедухъ. (Квараналълъ кьураб квегIалда лъазе кколареб). Ссадакъа кье рукъ бакъулареб, хIалтIи гьабе черхх чIвалареб. Ссадакъаги къадеквенги – дагьаб жо. Ссадакъаялълъ хьихьулессул къадруги букIинаро, бараб гIетIалълъ тIувалессул къиматги хвеларо. СсахIие жо рокъоб гьечIей, къолоде жо тIад ретIуней. СсахIил пайда гьабулаго, къолол зарал ккарабила. СсахIилги роцен лъазе ккола. СсахIихъ ссахI гурони щолареб. СсахIицца къеларо, къолоцца бергьинаро (Жо гуреб жоялълъул бицунге). СсахIицца хIама цIцIараб, рахъицца оц цIцIараб (хIал щун, унтараб). Ссвакарассда нух гурхIулареб, вакъарассда чед гурхIулареб. СсваквачIого чIчIани, чIчIечIого вилълъине кколев. Ссванилан ккараб цIа рекIинеги бегьулеб, ссванилан тараб питна цIилъизеги бегьулеб. Ссвараб ххвалчен, чарххида ккуни, рекIуна; гIантав чияссулги, гIадамалълъе вахъани, мадар лIугьуна. Ссверун къачIеб азбар – цаби гьечIеб кIал. СсалихIицца жергъен гIадин, рекъезабе. Ссан – дуе, хур – дие, бекьизе – дуе, кваназе – дие. СсанкIиний лъуниги, чIчIужугIадан цIунун бажаруларей. СсогIаб чу бичула, квегъуд буссунареб бугъа хъола. Малълъараб гьабуларей чIчIужуялда щиб гьабилеб? СсугъралIа чиясс гьабураб жо анкьго соналдассан гурони тIатунаребила. Ссугъур къан букъе, къехь биччан букъе. Ссундуе букIаниги, пал лълъикIаб къотIе. Ссундуего жиндир заман, ххасало-гIазу, риидал-цIцIад. СсундулIго роцен букIине кколеб. Ссундулго аххир букIунеб, анищалълъул бицен ххутIулеб. Ссургу гIадинги вукIунгейила, жини гIадинги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила (Ссургу гIадин хъалалъанги вукIунгейила, жини гIадин гъорлIанги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила). Ссуриялдасса хвелго лълъикIила. Ссурун хвей – кIицIцIул хвей.

  • tsts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Х [ 1. ХабалалIцин жиндие бакI гьечIев. 2. ХабалI жаназа лъелалде, цин гIурай яс россассе кье. 3. ХабалI лъуниги, ххиянат тIаде баккичIого чIчIоларебила. 4. ХабалI лъуниги, (ракьудасса) чияссул бер гIорцIцIуларебила. 5. Хахизе ракIалда – буртIида, лIутизе ракIалда – цIцIеда. 6. Хвалил зигара байги – чIагоязе кумекила. 7. Хвалил хIинкъи дандчIвани, гIонкIкIолги аздагьо лIугьунебила. 8. Хваниги йосила чияр яс, тIуниги бацIцIина квасул кун. 9. Хвараб бацIицца гIи гъурулареб. 10. Хвараб гъалбацIалдасса чIагояб гьойго лълъикIила. 11. Хвараб гIака – рахьдалаб. 12. Хвараб меххалълъ чиги кинавго лълъикIав, бахIараб меххалълъ букIараб чуги киназдассаго цIакъаб. 13. Хвараб ретIел нацIцIие, къадарав чи рагIуе. 14. Хварабниги чIорто дарайдул. 15. Хварав чи вагъаризавуни, бусен хъублъулеб, хвараб-араб жоялълъул бицани, ракIал хъублъулел. 16. Хварав чи каки – чIагоязе заралила. 17. Хварав чидай, хвечIев чидай? КIиго нухлулассда данде ккун руго хвел букъизе унел гIадамал. ГIолохъанасс херассда гьикъун буго - - Хварав чидай, хвечIев чидай молода вугев? - Мун гIадаллъунищ вугев, дир вас? РагIараб жо гуро хвечIев чи, молодаги лъун, вукъизе восун унев! ГIолохъанчи, херассул хIурмат цIунун, вуцIцIун чIчIун вуго. Къасси гьел щванила херассул росулIе. Ясалълъ инссуда гьикъанила - - Цадахъ вугев чи щив, эмен? - Нухда данделъарав дагьав гIакълу гьечIев гIолохъанчи вуго, дир яс. - ЩибгIаги гьесс гьабураб? Щиб ккараб, эмен? – ан цIехханила ясалълъ. - Гьабизеги щиб гьесс гьабилеб, дир яс. Дие гIантал суалал кьуна гьесс. Инссуцца ясалълъе бицанила хварав чияссул хIакъалълъулI гьесс гьикъараб жо. - ГIантаб жо гьикъун гьечIохха, эмен, гьесс дуда. Хварав чи вуго ххалкъалълъе инжитлъун хварав чи. ХвечIев чи вуго, живго хваниги, ххалкъалълъе жиндир ишалги цIцIарги нахъе тарав чи. 18. Хваразда ххадур чIагоял рилълъине бегьуларо. 19. Хваразе гурони, риччан таразе хоб бухъулареб. 20. Хваразул бицани, чIагоязул рахIат хола, араб-хваралълъул бицани, дандияссул рахIат хола. 21. Хварал рорчIизарулаго, чIагоязул тIом хIулулеб. 22. Хваралги релъила лъималазул рагIиялда. 23. Хваралги рикIкIани, гIухьби гIемерал, мутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал. 24. Хварассе зурма щайила. 25. Хварассул къулгьу гурел, гIурассул бертин гурел. 26. Хведал гурони, хьул къотIулареб. 27. Хвезе вокьарав чи кьолбоцца вецце. 28. Хвезе мехх щвараб меххалълъ хIама гъотIоде бахунебила. 29. Хвезе мехх щварав херасс я чIчIужу ячунейила, я чу босулебила. 30. Хвезеги гIажал кIудияб лълъикIила. 31. ХвезегIан чIаго тани, хвечIого рухI бахъугеги (НилI хвезегIан чилъи хогеги). 32. Хвел гьикъун бачIунаро, чIоралълъ чи цIеххоларо. 33. Хвелалдего хварав (чIагого хварав). 34. Хвеларев чIухIа, чIваларев вохха. 35. Холевлъи лъарабани, эмен цIцIамухъ вичилаанилан абурабила Мала Нассрудиницца. 36. Хвелилан давлад унарел, тIатинилан жо бикъулареб. 37. ХвечIого чияссул къимат лъаларебила. 38. Хераб гъветI турулеб, тараб хур чIунтулеб. 39. Хераб оцол пурццида ххадуб рахъ гъваридаб букIунебила. 40. Хераб хIамида рохьоб нух малълъизе кколареб. 41. Хераб бацIицца чахъу кIигоцадахъ хъамулебила. 42. ХерабгIан хIама сихIираб. 43. «Херав чи», – ян кIалъаге, мунги вукIине вугевин херав чи. 44. Херав чияссул ххиялал хабалIе цадахъ унел. 45. Херай йигониги, яс лълъикI, ххалатаб бугониги, шагьра лълъикI. 46. Херай чIчIужу ячарав гIолохъанчияссул буголъи, гьевги хун, хералълъе щварабила. 47. Херасс гIолохъанай лълъади ячани, кIиялго разилъичIеб даран кколебила. 48. Херассул – гIакълу, гIолохъанассул – къуват. 49. Херлъи бихьичIого, щивго хогеги, БихьичIезда лъазе щибжо гьебали. 50. Херлъи – гьойлъи. 51. Херлъигун гьойцца гьатIаналълъубцин хъублъи гьабулеб. 52. Херлъидал бацI гIонкIкIол цIцIобалде кколебила (Херлъидал цIцIумги къоркъол цIцIобалде кколебила). 53. Херлъиларев гьечIев, хвеларев гьечIев (Херлъиларев вохха, хвеларев чIухIа). 54. Херлъиялдасса баракат бугеб жо гьечIебила, тIаде бачIун гурони, тIасса унареб. 55. Херлъиялдасса квешаб жо – живго херлъун вукIин лъангутIи. 56. Херлъун ххадуб хъарчигъа тIанчIацца балъаргъунеб. 57. Херлъунилан бацI кваначIого чIчIолареб. 58. Херлъунилан бацIил цер лIугьинаро, цаби гъунилан ритIучIил багьа хвеларо. 59. Херлъунилан бацIицца бацIил гIамал толареб. 60. Херлъунилан оцолги гIалимчияссулги багьа холареб. 61. Хис-бас – шайтIаналълъул жо (дираб – дие, дураб – дуе). 62. Хоб тIупанагIан, ракI тIупулеб (ракь тIупанагIан, ракIалги тIупулел). 63. Холареб рагIиги букIунареб, рагIал гьечIеб авлахъги букIунареб. 64. Холареб ракI букIунареб, бахъунареб ццин букIунареб. 65. Холарев чи вукIунарев, холареб цIцIар букIунеб. 66. Холев чияссда ццебе нусго соналълъул гIумру чIчIолебила. 67. Хоно гьабизе – мадугьалихъе, кваназе – рокъобе. 68. Хоно – къурщил, къвакъвай – хъазил. 69. Хоно кьабун, гьецIцIо гъурулареб. 70. Хур асскIобегIан лълъикIила, гIагарлъи рикIкIадегIан лълъикIила. 71. Хур бекьичIесс хIанчIиларо, хер бецичIесс чIамиларо. 72. Хур босарав бечелъарав, рукъ босарав мискинлъарав. 73. Хур букIаго, ракъарал, рукъ букIаго, ругьарал. 74. Хур гуккуге, гьелълъ мунго дагьавги цIакъ гуккизе гурин (Дуцца хур цин гуккани, хуралълъ мун анцIцIул гуккулев). 75. Хур гьабулаго, рукъ хварай, рукъ гьабулаго, хур хварай. 76. Хур кIодолъиялдасса гьир кIодолъи лълъикIаб. 77. Хур лълъикIаб бугилан абе, тIорщел царгъинибе бараб меххалълъ, ххан лълъикIав вугилан абе, ункъабго къоно тIад чIвараб меххалълъ. 78. Хур-рукъ бичун аниги, инссул къо-асс бичун унареб. 79. Хур ЦIцIоробе балагьараб лълъикIаб. - Хур щай бичараб? - Пурццида кIутIизе гамачI батичIого. 80. Хурги дуццаго бекье, гьабихъеги мунго а. 81. Хурзал ракул цIуни, царгъал богIол цIола. 82. Хурзал чахIиял – чIамчIам дагьал. 83. Хуриб лълъикI жо бижизабизе Аллагьассде тIамун тоге. 84. Хуриб тIепаб, тIоххда ганжаб гьецIцIо тоге. 85. Хурибе ккараб хIамицца кIал кIудияб цIолеб. 86. Хурибе хьон – хьагинибе ххинкI. 87. Хурисса жо бачIинчIолъи чIарал гIайиб кколареб. 88. Хурищ бокьилеб, хурлъун дунищ? 89. Хурул мадугьал вакъарав ккаги, рукъалълъул мадугьал гIорцIцIарав ккаги. 90. Хурул хьон боцIцIийила, боцIцIул хьон рагIийила. 91. Хурул хьоналълъ чехь гIорцIцIаги, чохьол лъималаздасса ракI боххаги. 92. Хурулги рукъзабазулги бутIа бакьулIа босе. 93. Хурулги хьолболги цIцIину лълъикIаб. 94. Хурухъан кинав вугевали ххасалихълъиялълъ бицуна.

  • p | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Лълъ : Лълъадал берищ, рокьол гIусищ? Гьал рагIаби абуралила хIара чIварай ралила лълъадул угьи-зигараялде бер-ракI щвечIеб щайтIаналълъ. Кици тIамула бералълъулги гIусалълъулгигIан захIматаб унти гьечIебилан абураб магIнаялда. Лълъадал къатIраялълъги гамачI борлIулеб, цIадул хIенехIалълъги дунял бухIулеб. Лълъадаццаги жиндиего нух бахъула. Лълъади гьечIев россги росс гьечIей чIчIужуги – чIобогояб рукъ. Лълъади квешассул гIумру гIазабалда гирула. Лълъади лълъикIав лълъикI вуго, лълъади квешав квеш вуго. Кици гIунтIизабула Шамилил наиб Инквачилассде. Гьев цо росулIе щвараб меххалълъ, гIадамал гьессда гьикъарун руго: «Росу-жамагIат кин бугеб?» – ан. Гьесс жаваб кьун буго: «Лълъади квешав квеш вуго, лълъади лълъикIав лълъикI вуго», - ян. Лълъади чиярай лълъикIайлъун йихьулейила, чу нилIерабго цIакъаблъун бихьулебила. Лълъади ячине анцIгоявгун ургъе, йиччазе нусгоявгун ургъе. Лълъадигун вагъуларев лълъикьаниги къоларев. Лълъадул букIунебила букарулеб бакI, буххичIони букари къотIулареб. Лълъадул гIагарав чияссул яс васассе ячунге. Лълъадул ригьнивги вукIунге, лълъадул гIакаги хьихьуге. Лълъадулгун кколеб къеццалдасса тIагIам гьечIеб дандежо букIунареб. Лълъеда бараб полоп гIадаб жойила росс-лълъадиялда гьоркьоб кколеб кьал. Лълъеда бахъун накъищ чIчIолареб. Лълъеда тIад хъвадарун, ххатI лIугьунареб. Лълъеда хIал барасс бахъухъ цIцIикIкIун кваналеб, хIохь бахъарасс хIалтIи цIцIикIкIун гьабулеб. Дибирасс къулгьудалълъе цадахъ васги вачун вукIун вуго. Васассни лълъим гIемер гьекъей рекIее гIечIев дибир васассухъ квеш валагьулев вукIун вуго. Рокъоре щвараб меххалълъ, дицца мун къулгьудалълъе лълъим гьекъезе вачун вукIинчIин, бахъухъ квине вачун вукIанилан, дибирасс вас вуххун вуго. Дадайилан абун буго «гъадидасса цIцIодораб тIанчIицца», жинда рагIун букIанила, лълъим гьекъани, бахъухъ гIемер кваназе кIолилан. Дуцца дида гьеб некIого щайин бицун букIинчIебилан дибирасс вас кIиабизеги вацIун вуго. Лълъедасса лълъетIахъан хIинкъуларо, хIалтIудасса хIалтIухъан лIутуларо. Лълъеде мугъ чIваге, гьерссиде ракI гъоге. Лълъел къимат лъалебила къиндал, чияссул къимат лъалебила хведал. Лълъел цIолеб къулгIаялда асскIоб рукъ бугей эбелалълъул яс ячунге. Лълъел къимат лъалебила къиндал, чияссул къимат лъалебила хведал. Лълъел цIолеб къулгIаялда асскIоб рукъ бугей эбелалълъул яс ячунге. Лъелго вилълъинчIессда рекIадул къимат лъалареб. ЛълъетIа хIуччалги рахъуге, цIцIалкIуялълъ ралъадги буххуге. ЛълъетIасса тIорахь бахъулев. Лълъецца – гьобо, цIецца – кор. Лълъеца ордек биччулареб, бугьтаналълъ чи хъублъуларев. Лълъецца нух балагьулеб, гулица тушман валагьулев. Лълъида бихьарабги – «жиндаго бихьарав», лълъида рагIарабги – «жиндаго рагIарав». Лълъиданиги нилI инжит гьаризе кIоларелила, нилIеццаго гьаричIони, лълъиццаниги гIодорегIанги гьаруларелила, нилIеццаго гьаричIони. ЛълъикI букIаго, патихIа. ЛълъикI вугилан чIухIуге, квеш вукIараб меххги ракIалде щва. ЛълъикI вукIани, вокьулев, квеш вукIани, рихунев. ЛълъикI хьвадарав квеш холаро, квеш хьвадарав лълъикI холаро. ЛълъикI хьвадизеги дурго чорххол иххтияр – духъ, квеш хьвадизеги – духъ. ЛълъикIаб батани – канае, квешаб батани – цIулае. ЛълъикIаб бугъицца къуралде лIар хьвагIулареб, лълъикIав чиясс чияе чIухIи гьабулареб. ЛълъикIаб гара-чIвариялдаги киналълъулго бицунареб. ЛълъикIаб гьудуллъи ххазинаялдасса лълъикIабила. ЛълъикIаб – гьурщулеб, квешаб – баххчулеб. ЛълъикIаб дару кьогIаб букIунеб, лълъикIай чIчIужу хIеренай йикIуней. ЛълъикIаб жо беццизе кколареб; беццунилан квешаб жо лълъикIлъулареб. ЛълъикIаб жоялълъе къей гьечIеб, къадаралълъе бергьенлъи гьечIеб. ЛълъикIаб кечI чIалгIунареб, лълъикIаб ххабар рихунареб. ЛълъикIаб кициялълъул баракат насслабазего щолебила. ЛълъикIаб къайи босеян гьаризе кколаро, лълъикIай яс ячине чи камуларо. ЛълъикIаб къверкъ жибго бижараб хьуцIцIилI чIчIолеб. ЛълъикIаб кIалдибе босе, квешаб гIодобе реххе. ЛълъикIаб лъазе азарго къоги дагьила, квешалде ругъунлъизе цо къоги гIемерила. ЛълъикIаб малълъ босичIессда лълъикIаб къо бихьуларо, эбел-эмен разияв кинго басралъуларо. ЛълъикIаб нассихIат босулареб бетIер – рагьлил асар босулареб ссинухIатI. ЛълъикIаб рагIи – рукъалълъе ххайир, квешаб рагIи – гIадалI базе зар. ЛълъикIаб рагIуда мал бани, квешаб хIехьезе кколеб. ЛълъикIаб рагIул багьа – кьолораб чу. ЛълъикIаб ретIел ретIани, ссурукъайги берцинлъулейила. ЛълъикIаб ххассият берцинлъиялдасса лълъикIаб. ЛълъикIаб ххатIги – бащдаб гIелму. ЛълъикIаб хьоналда – лълъикIаб, квешаб хьоналда – квешаб. ЛълъикIаб хIайваналълъ нилI хьихьулел, квешаб хIайван нилIецца хьихьизе кколеб. ЛълъикIаб хIалалълъ гьарани, эххебе унеб лълъимги лъалхъулебила. ЛълъикIаб цIарагIалда цIадул бетIер букIунеб. ЛълъикIаб цIцIаргун хвейго лълъикI, ххалкъалълъе инжилъун, чIаго вукIинегIан. ЛълъикIаб чое даран гIемераб, лълъикIав чияссе гьудулзаби гIемерал. ЛълъикIаб чое хIалхьи толареб, лълъикIаб хIамие хIалтIи камулареб. ЛълъикIаб чое – цо цIцIал, лълъикIав чияссе – цо рагIи. ЛълъикIаб шитил – лълъикIаб бачIен. ЛълъикIабги бихьагийила, квешабги бихьагийила. КвешлъигIаги щай къваригIараб жоян гьикъараб меххалълъ, магIаруласс жаваб кьун буго: квешлъи бихьичIони, лълъикIлъиялълъул къиматги лъаларила, дагьабниги квешлъи бихьичIев чиясс къо ккараб бакIалда къвалги къаларилан. ЛълъикIабщинаб жубан гьабураб меххалълъ, квешаб жо лIугьунареб. ЛълъикIав Аллагьасс квешаб жо гьабулареб. ЛълъикIав багьадур вагъун хола, хIамабагьадур чIухIун хола. ЛълъикIав бахIарчи лълъикIаб рагIиялълъ тамахлъулев, къадарав бихьинчи лълъикIаб бицанагIан къвакIулев. ЛълъикIав бахIарчи ццеве тамахлъулев, нахъа къвакIулев; къадарав бахIарчи ццеве къвакIулев, нахъа тамахлъулев. ЛълъикIав бахIарчиги вукIунев, цIакъав бахIарчиги вукIунев. ЛълъикIав бахIарчияссдасса щивниги хIинкъуларев, къадарав чияссдасса киналго хIинкъулел. ЛълъикIав бахIарчияссул вас къадаравиланги тоге, къадарав чияссул вас бахIарчийиланги тоге. ЛълъикIав бихьинчи чIчIужугIадангун вагъуларев, лълъикIаб хIелеко гIанкIугун багъулареб. ЛълъикIав гьудул гьечIессда жиндирго гIайибал лъаларел. ЛълъикIав гьудулассда данделъараб къо – тIолабго дуниял дуе щвараб къо. ЛълъикIав инссул квешав васги, квешав инссул лълъикIав васги вукIине бегьулев. ЛълъикIав-квешав чи лъала, гьудулассухъ балагьун (Дур гьудул щивали бице, цинги дицца мун щивали бицина). ЛълъикIав мадугьал гьечIев чи – бищунго чиякъав чи. ЛълъикIав мадугьал кинав ватаниги ваццассдасса лълъикIав. ЛълъикIав хIакимасс гIадлу жиндассангойила байбихьулеб. ЛълъикIав чиясс квешлъи гьабурассеги лълъикIлъи гьабулеб, хIалихьатав чиясс лълъикIлъи гьабурассеги квешлъи гьабулеб. ЛълъикIав хIалтIухъанассул кIал чIчIун букIуна, кверал хIалтIулел рукIуна; квешав хIалтIухъанассул кIал хIалтIулеб букIуна, кверал чIчIун рукIуна. ЛълъикIав чигун квараб ххинкI квешав чигун квараб гьоцIцIоялдасса гьуинаб. ЛълъикIав чиясс жибги чIваларин, къадарасс чIвазе жибги чIчIеларилан абурабила гIодоб рещтIараб хIанчIчIицца. ЛълъикIав чияссда гIадамал цIакъаллъун рихьулел, квешав чияссда бищунго цIакъавлъун живго вихьулев. ЛълъикIав чияссе гьабураб лълъикIлъи – нухде бараб тIехх; квешав чияссе гьабураб лълъикIлъи – гьойдуе гьабураб хьит. ЛълъикIав чияссе гIумру дагьаб, гIабдалассе хвел дагьаб. ЛълъикIав чияссе лълъикIаб мацIцI рекъола, квешав чияссе квешаб мацIцI рекъола. ЛълъикIав чияссе лълъикIлъи гьабуни, лълъикIлъиялълъе батулеб, квешав чияссе лълъикIлъи гьабуни, бадиб багъизе батулеб. ЛълъикIав чияссе рецц-бакъ къваригIунаро. ЛълъикIав чияссе – цо рагIи, лълъикIаб чое – цо цIцIал. ЛълъикIав чияссул багьа – данд цIцIараб месед. ЛълъикIав чияссул букIунеб жо – гьари, квешав чияссул букIунеб жо – хьами. ЛълъикIав чияссул васассулI, кигIан квешав вугониги, цогIаги инссул гIаркьел камулареб. ЛълъикIавги квешавги ватIа гьавизе гьойдаги лъалев. ЛълъикIавги квешавги чи чодаги лъалевила. ЛълъикIавги рагIулевила, квешавги рагIулевила. ЛълъикIавги хола, цин-цин лълъикIлъиги хола. ЛълъикIай лълъадиялда бащадаб жо щибго гьечIеб. ЛълъикIай чIчIужу – анибго алжан, квешай чIчIужу – анибго жужахI. ЛълъикIай чIчIужу горбогьод гIадай йикIуней. ЛълъикIай чIчIужу, нуцIцIихъан къватIие йитIани, гордухъан нахъ юссун ячIунейила. ЛълъикIазулIа хъамурай, хъахIазулIа йищарай бищун квешай ятарай. ЛълъикIал ракьулIе уна, квешал кьочIчIокье уна. ЛълъикIалда мал бани, квешалда къвал базе кколеб. ЛълъикIассда ккараб налъи – нахъарукъ, квешассда ккараб налъи – магIирукъ. ЛълъикIассдассан – лълъикIлъи, квешассдассан – квешлъи. ЛълъикIассул лълъикIлъиги квешассул квешлъиги кидаго кIочонареб. ЛълъикIго кьолеб микьирги, тIадго арав гьоболги. ЛълъикIлъи бихьарассул – кар, квешлъи бихьарассул – малъ. ЛълъикIлъи гьабе дуе квешлъи гьабурассеги, тIасса лIугьа дудасса къолессдассаги. ЛълъикIлъи гьабе, квешлъияли жибго бачIина. ЛълъикIлъи гьабизе кIолареб батани, квешлъигIаги гьабуге. ЛълъикIлъи гьабулел Аллагьассда кIочон толарел. ЛълъикIлъи гьабурав аххир воххулев. ЛълъикIлъи гьабурассе баркала кьейги – мухьалда бащалъулеб. ЛълъикIлъи гьабурассе квешлъи гьабичIого, сордо рогьунаребила. ЛълъикIлъи гьабурассул квешлъиялдасса цIунаги. ЛълъикIлъи гьабурассул лълъикIлъиги квешлъи гьабурассул квешлъиги аххир-къадги жидеего ратулелила. ЛълъикIлъи гьоркьоб гьечIеб квешлъиги, квешлъи гьоркьоб гьечIеб лълъикIлъиги букIунаребила. ЛълъикIлъи гIадада холареб. ЛълъикIлъи кватIулебила, квешлъи ххеххго тIаде щолебила. ЛълъикIлъи-кумек гIагаразе гIадин гьабе, даран-базар чияразе гIадин гьабе. ЛълъикIлъи лъаларев чияссе лълъикIлъи гьабурав чи – хIамида меседил кIиликI барав чи. ЛълъикIлъи лълъикIав чияссда гурони лъалареб. ЛълъикIлъи малълъарав – тушман, тIад рекъарав – гьудул. ЛълъикIлъи хIехьезе аххтачодаги хханассул васассдаги гурони кIоларебила. ЛълъикIлъи хIехьечIесс, квешлъи хIехьолеб. ЛълъикIлъиги бихьаги, лълъикIлъиялълъул къимат лъазе; квешлъиги бихьаги, квешлъиялълъул кьогIлъи лъазе. ЛълъикIлъиги квешлъиги – кIиябго чияссдассан. ЛълъикIлъиялда ххадуб квешлъиги, квешлъиялда ххадуб лълъикIлъиги камулареб. ЛълъикIлъиялда ццебе – квешлъи, квешлъиялда ццебе – лълъикIлъи. ЛълъикIлъиялда данде лълъикIлъи гьабизе кIвечIони, кIочонтунгутIиги – мадар. ЛълъикIлъиялдасса квешлъи бергьунареб. ЛълъикIлъиялълъ квешлъи гьабулареб, квешлъиялълъ лълъикIлъи гьабулареб. ЛълъикIлъялълъе бицараб рагIи ссадакъа бугила. ЛълъикIлъиялълъе гIей гьечIебила. ЛълъикIлъиялълъул лълъикIлъиги холареб, квешлъиялълъул квешлъиги холареб. ЛълъикIлъиялълъулги квешлъиялълъулги тIанчIи гIемерал. Лълъим бахунелълъул гурони, чахъдада бацI кIочонареб. Лълъим бегараб гьобо гIадин. Лълъим бегараб гьобо гIадинги вукIунгейила, цIцIадае гъугъалеб зоб гIадинги вукIунгейила. Лълъим гьечIеб кIкIалахъ вукIун, лълъадад чи гIорцIцIуларев. Лълъим гьечIеб магIарда чу кIутIулареб, къачIеб магIардасса ххер бецулареб. Лълъим гIемерабгIан гIор – гIодобе биччараб, гIакълу цIцIикIкIаравгIан чи – гIамал берцинав. Лълъим гIемерлъунилан ралъад гьалаглъулареб, гIелмуялълъул цIунилан керен хIалуцунареб. Лълъим гIодобе тIолебилан, цадахъ лъимерги реххуге. Лълъим дагьлъани, гьобо чIчIола, кванил низам биххани, черхх загIиплъула. Лълъим дагьлъигун, гьабил гIузраби тIатуна, херлъараб меххалълъ чорххол гIузраби тIатуна. Лълъим рахънибе ккола, чи нухде ккола. Лълъим ссвакаларебила, сабаб тIагIунаребила. Лълъим тIад речIчIичIони, раква ссверулареб. Лъимадул бетIер унтани, эбелалълъул ракI унтулебила. - Лълъицца вакарав? - Дадацца. - Лъицца хьихьарав? - Дадацца. Лълъицца хъван бугебали балагьугейила, кин хъван бугебали балагьейила. Лълъицца щиб бицаниги, бацIицца ххер кунаро. Лълъицца щиб бицаниги, бищунго гIакълу бергьуна. Лълъудби гIемерав чи холаревани, Инсудада жеги херлъилароан. Руччабазул даран беццарабани, Дарбищил каранда маххел балаан.

  • xkh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЦI ` 1. ЦIа бакаралълъуве кIкIвелун, кIкIуй баккаралълъуве гьелун. 2. ЦIа босизе арай гьолокьей россассе арайила. 3. ЦIа гьечIеб кIкIуйги кIкIуй гьечIеб цIаги букIунареб. 4. ЦIа гьечIелълъуб кIкIуй букIунареб, лълъим гьечIелълъуб хьуцIцI букIунареб. 5. ЦIа рокъоб ккурай, бакъ рагъида ккурай. 6. ЦIа ссвараб цунтуралда кан бакизе кIоларо. 7. ЦIаги лълъимги асскIоб чIчIоларо, гьекъолдухъанассул чвантиниб гIарац чIчIоларо. 8. ЦIаги лълъимги гIадин рукIунге. 9. ЦIаго бакилалде, кIкIуй бахъарал. 10. ЦIагIел – дур, сакI – дир. 11. ЦIадаб бачIеб чед кунев Бигищ гIадин. Гъассда кIиябго рахъ кьеризабураб, жиги цIадаб бачIеб (тIаде цIа хъван бежизабичIеб) чедги корол хIамаялда базабун, цо гьитIинаб къваригIелалълъ къватIие ун йиго Бигищил чIчIужу. Гьагъаб параялда рокъове щварав Бигищ чед квине лIугьун вуго. - Вуйгь! Дуцца гьабулеб жо щиб, Бигищ, цIадаб бачIеб чед кунев! – ан чIчIужуялълъе кIудияб кеп щвараб меххалълъ, Бигищицца абун буго: - Рецц Аллагьассе буго! Унго, гьединищ иш букIараб! Валлагь-биллагь, дида ккун букIана дунго унтун ватилилан! 12. ЦIадабе бегьараб квер бухIичIого ххутIуларо. 13. ЦIадабе нарт тIолареб. 14. ЦIадул кутак лълъецца чIвалеб, загьрудал кутак даруялълъ чIвалеб, хIалхъублъиялълъул кутак ссунццаниги чIвалареб. 15. ЦIадулгун маххссара те, лълъадалгун божилъи те. 16. ЦIакъ ворххани, тIепула, тIепун чIчIани, ворххула. 17. ЦIакъ къвакIани, бекула, тамахлъани, гьетIула. 18. ЦIакъ лъала гIонкIкIода мугьал щолеб бакI. 19. ЦIакъ хIапулелълъ хIанчIулареб, ккун чIчIоларесс кьабулареб. 20. ЦIакъав чини вугоанила мун, дагьав гIантав гьечIевани. 21. ЦIакъалдасса цIакъаб жо камулареб. 22. ЦIакъго витIаравлъунги вукIунгейила, цIакъго гIакъилавлъунги вукIунгейила. 23. ЦIакъго гьаракь борххунги кIалъаге, кето гIадин, мимидизеги мимидуге 24. ЦIакъго гIакъилассул гьудулзаби дагьалила. 25. ЦIакъго гIемераб бечелъи бокьарав бугелдассаги ватIалъизе бегьула. 26. ЦIакъго рецц бокьулев ххадув беццлъизеги бегьулев, гIинкълъизеги бегьулев. 27. ЦIакъго рокьиялълъила катицца жиндирго тIанчIи кваналел. 28. ЦIакъго хIинкъарассда асскIореги къаларелила щайтIаби, ракI кьвагьун, гьев хвезе гурилан; цIакъав бахIарчияссда асскIореги къаларелила, жидеего зарал гьабиялда хIинкъун. 29. ЦIакъго чIухIарав чIвалев, унти баххчарав холев. 30. ЦIакъго эххеде ворххарав гIодов квеш речIчIулев. 31. ЦIаялде гIагараб гIарахъ бухIичIого ххутIулареб. 32. ЦIаялълъила цIа бакулеб. 33. ЦIел хIалтIи цIецца гурони гьабулареб. 34. ЦІеххезе чи щвечІони, хІохьода цІеххонги, цІеххечІого тогейила. 35. ЦIибаккараб босе, басралъун хвараб нахъе реххе. 36. ЦIиданделъарал росс-лълъади ругеб рокъобе илбис лIугьунаребила, базаралдеги бачун, бичилебилан хIинкъун. 37. ЦIида бацIцIунилан бацIицца бацIил гIамал толареб. 38. ЦIидалълъго раса-цIцIалкIу магIидайила. 39. ЦIиял башмакъазул къуцIи берцинаб, цIияй бахIаралълъул гIеретI гвангъараб. 40. ЦIияб жо лъималазда лъала, умумузда басриябги лълъикI лъала, цIиябги бихьула. 41. ЦIияб нух – цIияб рукъ. 42. ЦIияб ретIел ретIараб басрияб щайтIан. 43. ЦIиябги босе, басриялълъулги къимат гьабе. 44. ЦIиябищ, гьанже гьабурабищ? 45. ЦIиялълъ басрияб хисулеб, басиялълъ оц хисулеб. 46. ЦIубанагIан тIор гIодобе къулула, бечелъанагIан чи эххеде валагьула. 47. ЦIул бугони, гIащтIи камиларо. 48. ЦIулада бараххщун, цIа ссвине тарай, ЦIцIилцIцIида бараххщун, рукъ чорок тарай. 49. ЦIулада рекIараб цIа ссунеб, тIулида рекIараб цIа ссунареб. 50. ЦIулада цIа рекIани, бухIун лIугIула, ссуна, рекIеда рекIараб цIа кидаго ссунаро. 51. ЦIулакьодул гъотIода микьир бижуларо. 52. ЦIулалълъ рекъолареб канал ноцIцI гIадав, къадалI рекъолареб гьецIцIо гIадинав. 53. ЦIуна-къай гьечIезул къоял, чияда ццере квералги ккун, унелила. 54. ЦIуна-къай Ираналълъулгун даран-базаралдасса бергьунебила. 55. ЦIуна-къай къарумлъи гуро. 56. ЦIуна-къараб жоялълъе къо камулареб. 57. ЦIураб гIертIинибе лълъим тIолареб. 58. ЦIураб рагIинибе лълъимги тIоге, лълъеда накъищги бахъуге. 59. ЦIуралълъухъ цIураб кьолеб жойила гIорто. 60. ЦIураххинкIазулцин лълъикI гурила бо.

  • p | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Лъ ; Лъабго нухалълъгIаги баччизе ккечIони, гьирил бакIлъи лъаларебила. Лъабго соналълъ ургъараб барагъидул хъабало, Чоде яхинчIониги, гIайиб гьабилароан. Лъабго сордо базегIан гьоболассда кисаянги гьикъуге; кисса-щиван лъаларессе рекIел кIулалги рагьуге. Лъабго ххинкIги памадурги ма, гважи! Лъабго цIияб цIулакьо кун вегарав васассда тIаде лъабцIцIул ваккаравила жугьутIав. ЛъабкъотIнобе реххараб жо къваригIараб къоялълъ батулареб. Лъабкъого сон барав чи – лъилъизе мехх щвараб пурчIина. ЛъабмоцIцIрол кIал ккурав муъминчи гIадин. ЛъабцIцIул абурабила дуда лъалилан, лъабцIцIул абурабила дуда щиб лъалебан. Цо лъарагIавилан бицуна магIарулаз, лъабцIцIул бечелъаравила, лъабцIцIул мискинлъаравила. Бечелъанщинахъе жамагIат гьесс бицараб жоялда тIад рекъолеб букIарабила, дуда лъалилан. Мискинлъанщинахъе кIалъазе виччаларев вукIаравила, дуда щиб лъалебан. ЛъабцIцIул къинлъичIого, гIака лъалареб. ЛъабцIцIул рагIа-ракьан бухъичIого, хур бачIунареб. Лъавукълъи букIуна гIакълулъун хIалеб, жагьиллъи бахъуна жибги гIелмуян. ЛъазегIан ххарбил багьа – нусго томен, лъан ххадуб – кIиго кепек. Лъай гьечIевгIан чияссе малълъаризе бокьулебила. Лъай гьечIелгун ургъани, ургъалабалъе ккола. Лъай цIцIикIкIине бокьани, щибго лъаларевлъун хIай. Лъайги гIакълуги чияе бикьанагIан гIемерлъулеб. ГодекIанив, гIемерал гIадамал ракIарараб бакIалда, Маланассрудин вукIун вуго гIадамазда малълъарулев, гьезие гIакълаби кьолев. Цоясс гьессда гьикъун буго: - Маланассрудин, дуцца, расги бараххщичIого, лъайги гIакълуги бикьула. Мун хIинкъуларищ дурго гIакълуги лъайги, гIадамазе бикьун, лIугIилилан? - ХIинкъуларо, - ян жаваб кьун буго Маланассрудиницца. – Лъайги гIакълуги буго бикьанагIан гIемерлъулеб жо. ГьанжелъагIан дида лъалеб букIараб жо гьанжеялдасса ххадуб нуже-нужедаги лъазе буго. Лъалаго «Ия». Жибго гьитIинаб, магIнани бугеб гьаб кIиго рагIул кьучIчI лъималаздассан байбихьула. Лъималаз чалтук тIола. Тоххлъукье жиндир цIцIар ахIараб меххалълъ, «ия» – ян жаваб кьурав къола. Гьоркьоб лъураб жоги дандеяссе щола. Нагагь жаваб кьолесс «лъалаго ия» – ян абуни, итаравлъун (кьуравлъун) рикIкIунаро. Щай гурелълъул, гъосс ццебеккунго лъазабулеб буго жинцца жаваб тоххлъун кьолеб гьечIеблъиги, къотIи ракIалда букIинги. КIудиязда гьоркьор гьал рагIаби абилъун лIугьун руго. Гара-чIвариялда жаниб жинда лълъим гIадин лъалеб жоялълъул хIакъалълъулI, лъалареб ххвелги гьабун, кIалъалев чияссда дандеясс абула «лъалаго ия» бицунгеян. «Лъалаго ия» бицун, лъалареб ххвел гьабуге. Лъалареб бакIалда адабги гьабуге, гIорцIцIулареб бакIалда гIодовги чIчIоге. Лъалареб бакIалдеги бачун, жиб чуйилан бичейилан абурабила хIамицца. Лъалареб нухдассан сапаралде унарел. Лъаларилан абураб къоялдасса цIунаги, лъеберилI малълъизе ккарассдасса Аллагьассги цIунаги. Лъаларо – кIуркIил, кIоларо – вархIил. Лъалароги кIолароги баццалила. Лъалароялде чи ккогеги, чияр цIцIобалде рукъ ккогеги. Лъалев тушман цин квешав, лъаларев тушман нусцIцIул квешав. Лъалесс малълъараб гьабичIев мурадалде щоларев. Лъалесс чу босе, лъаларесс куса босе. Лъалессдаги цIеххе, мунгоги ургъе. Лъалессе бигьаяб жойила гьабида гIентIеро базе. ЛъалкIалълъ гIанкIкI кколебила. Лъани – маххссаро, лъачIони – гажи. Лъанщинаб бицинги мунагьила. Лъанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб. Лъанщинабги бицунгейила, бицунебги лъан бицейила. Лъар бахине кIоларесс гIор бахунаро. Лъар гIечIелълъубе гIорги кIанцIана. Лъараб жо кIочон толев чи – охх унеб гьобо. Лъараб жоялълъул зарал букIунареб; загьруги лъазабе, гьекъечIого тезе. Лъарабани дуцца дун лъарахъго чIвалаанилан абурабила хIамицца бацIида. ХIама букIун буго лъарал рагIалда. ТIадеги бачIун, бацIицца хIама чIвазе къассд гьабун буго. ХIамицца бацI божизабун буго, жиндир кьариял кIуртул ругин, къасси жинцца дуе гьелги кьелин, жиб чIвагеян. СихIираб хIамил хIилаялда божараб бацI къасси бокьалълъул кIалтIе бачIун буго. ХIамицца рицун рукIарал кIуртузул цIаразда гьоркьосса «Лъараб», – ан бацIицца ахIараб меххалълъ, хIамицца жаваб кьун буго: «Лъарабани, дуцца дун лъарахъго чIвалаан!» ЛъарагI гьакитIа – лъарагI кечI, магIарул гьакитIа – магIарул кечI. ЛъарагI мацIцI бицунилан, цIцIамухIор бетиларо. Пуланаб росдал гIадамазда чIалгIун буго цIцIам босизе лъарагIлъиялде хьвади. Гьез хIукму гьабун буго, цIцIамги бан, жидерго хIор бетизабизе. КигIан гIемер цIцIам баниги, хIор бетун гьечIо. Нахъеги хIукму ккун буго, лъарагI мацIцI бицанигIаги бетилародаян. Гьединги бетун гьечIо. Гьеб меххалълъ цо чIчIужугIаданалълъ абун буго: - «Ле гIадамал, лъарагI мацIцI бицунилан, цIцIамухIор бетиларо, гIадалал жал гьаруге!». ЛъарагIаб гьойцца гурони, лъарагIаб гIанкIкI кколареб. ЛъарагIассул гьакицца гIанкIкI ккурабила. Лъарахъе щвечIого, хьитал рахъуге, чорххол хIал лъачIого, рагIиги бицунге. ЛъаргIиве аниги, къолго вуссунев, Къарахъе аниги, сордо баларев. ЛъаргIире – цIцIамде, ЦIцIороре – билде. ЛъаргIиссан гъугъани – цIцIер, ЦIцIороссан гъугъани – бакъ. Лъаялда ххадув Хъитаналде щвезегIан инеги кIкIухIаллъугейила. Лъаялдасса чIухIарав жагьиллъиялда ххутIула. Лъебелазул кун цIакъаб, куралазул дум цIакъаб. Лъезе лъаларесс тIагъур бахъуге. Лъимал гогьдаризаруни, эбел-инссуда бадир ралел, чIчIужу гогьдаризаюни, россассул бетIералде яхуней. Лъимал гьаризе кIудияб гIакълу-лъай къваригIунаребила. Лъимал гьаричIев херав чи – кьалбал турараб гъветI. Лъимал гьаричессда рокьи лъалареб, лъимал хвечIессда рухIел лъалареб. Лъимал гьаричIессда ругеланищан кколебила, гьарурассда гьаризего гьаричIеланищан кколебила. Лъимал гьечIеб гIумру – бакъ гьечIеб рагIад. Лъимал гьечIеб къоги бачIунгеги, лъималазда божунги ххутIугеги. Лъимал гьечIеб рукъ – лълъим бегараб гьобо. Лъимал гьечIессе – цо ургъел, ругессе – нусго ургъел. Лъимал гьитIинаб меххалълъ – гьитIинаб ургъелила, лъимал кIодолъигун – кIудияб ургъелила. Лъимал гьоркьоб гьечIеб ригьин биххи – оц-гIакаялълъул даран биххи. Лъимал гьоркьор ругеб ригьин биххи – бащдаб къиямассеб къо. Лъимал – гьоцIцIо, боцIцIи – рухI. Лъимал гIечIого, эбел-эмен ургъалилъе кколарелила. Лъимал гIиссинал рукIун, кьижизе течIо, гьелги кIудиял гIун, кьижизе кIвечIо. Лъимал кIодолъичIого, эбел-эмен макьидасса ригьунарел. Лъимал ругей къоролай гIакъиласс ячинаро, гIакълу бугеб цIцIуяб жо гIабдалассе инаро. Лъимал ругеб рокъобе илбис къаларебила. Лъимал ругей къоролай гIакъиласс ячунаро, Хераб хIама босарав дармицца воххуларо. Лъимал руго – чед гьечIо, чу буго – кIалцIи гьечIо. Лъимал ругониги – балагь, лъимал гьечIониги – балагь. Лъимал хвани, умумузда къиямассеб къо чIчIолебила; умумул хвани, лъималаз тIехх тIагIун букIун батилилан абулебила. Лъимал хIинкъизаруни, гьересси бицунеб, ракъизаруни, жо бикъулеб. Лъимал тушманассулги ракъугегийила. Лъимада пардав гьечIеб. Лъимадуе гIоло эбел цIадаеги кIанцIулейила. Лъимадул щиб унтаниги, цадахъ эбелалълъул ракIгийила унтулеб. Лъималаз гуккарал гIолеб, лъималазул лъималазги гуккизе рукIунге. Лъималаз жидеего бокьулеб маххщел гьитIинго тIасса бищулеб. Лъималаз эбел-инссуе щиб гьабун батаниги, гьезул лъималаз гьезиеги гьебго жо гьабулеб. Лъималазда релълъун ца бихьуге, ццидал расги бихьуге. Лъималаздасса лъималазул лъимал ххириялила. Лъималазе алжан – эбел-инссул гьабураб адабалълъухъила. (Лъималазе алжан – эбелалълъул хIатIикьила) Лъималазе гIоло гIорги къулчIчIизе кколебила, мегIерги кIкIвине кколебила. Лъималазе къотIи гьабуге, гьабун ххадуб тIубазабе. Лъималазе цо чIчIараб рагIи бице, дур рагIи хисанищ – хвана мун! Лъималазе чед гурев, чое базе ххер гурев. Лъималазул унти – эбел-инссул гьумер нечараб жо. Лъималазул ярагъ гIодийила, гIадамазул ярагъ ххвалченила. Лъимал гьечIев чияссда боцIцIи лъимерлъун бихьулебила. Лъимер лъезе чехь гурей, чоххтIо кквезе гъал гурей. Лъун бихьараб кьили лълъикIаб, кьвагьун бихьараб ярагъ лълъикIаб. Лъураб бугьтан рихун хвезе вахъунге, Пихъ гьечIеб гъотIода тIил речIчIуларин. ТIадагьаб къавмалълъул къил-къвал цIеххоге, ЦIцIамул гьирал рецIцIун, гьоцIцIо кьоларин.

  • tsts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Къ q Къабулаб ссадакъалъун батаги. Къад гьабураб бихьулеб, къасси гьабураб рагIулеб. Къад кьерхун, къасси роцIцIун – хур-ххералълъе балагь, херав чияссул бахIарай лълъади – рукъалълъе балагь. Къад маккалълъ, къасси хIанчIчIалълъ. Къадада гьикъарабила мун кида биххулебилан. Гьелълъ абурабила, кьекIкIелалда гьикъеян. ХIамица абурабила, цо гамачI кколеб кьекIкIлаццайищила мун кколеб, гьале гьаб жинцца кколилан. Къададаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел. Къадал кьучIчI хIамайила, хIуби кьекIкIелила. Къаданиб гIарцул таргьаги лъун, вакъуцца хварав. Къадараб жо гьабизе бегьулареблъи лъалеб гIадин, къадараб цIцIар лъеларедухъ хьвадизеги лъазе кколеб. Къадараб бакIалдассан ригьин гьабуни, къо ккедал ватуларев вас гьавулевила. Къадараб чода рекIун иналдасса, раччиги баччун, лъелго ин лълъикIаб. Къадарав гьудуласс унтидал тола, лълъикIав гьудуласс хабал рагIалда гурони толаро. Къадарав чи къурассда тIасса вахъунарев, бергьарассда гъоркьа вахъунарев. Къадарав чи сабаблъун нусгоявги ссурулев. Къадарав чияссдасса къасси гъассдакквелалълъе бараб къвалиго лълъикIила. Къадарав чияссе гьабураб лълъикIлъи – гьойдул габуралда бараб месед. Къадарав чияссе гьабураб лълъикIлъиги – дуего балагьалъе, лебалав чияссе гьабураб квешлъиги – дуего балагьалъе. Къадарав чияссе лълъикIаб бициналдасса лълъикIав чияссе наку чIвайго лълъикI. Къадарав чияссул багьа – къан рачIчI ккун цIцIе. Къадарав чияссул чIухIи кьолбол кIодолъиялдалъунги букIунеб. Къадараван абизеги бокъуларев, къадарлъиги толарев. Къадахъаби гIемерлъани, къед гьетIараб лIугьунеб. Къаденахъе мегIерги бегуге, бакъанида росуги тоге. Къадкиццагицин цин бусен гьабула, ххадур тIанчIи рахъула. Къадру гIолохъанго цIунейила. Къажар базаралда кинавго чи беццав ватани, гьезда релълъине цояб бер дуццаги къинкIейила. Къажарасс хIамида тIилги, мухь кьечIого, кьабуларебила. Къажарассулги хIамилги херлъи-бахIарлъи лъаларебила. Къазе кIолареб кIалтIуги рагьуге, бичизе кIолареб гарацIцIги баге. Къазе цаби гьечIони, кIутIбигIаги рукъе. Къайи босе, дурго рокъоб рекъараб, чIчIужу яче, дургун гIамал рекъарай. Къали цIцIамул цадахъ чIчIикIичIого, чи лъаларев. Къалмил мацIцI – бегIераб жо. Къалмицца басанщинаб жоялълъул ххабар лIугьунареб, ракIалде щванщиналълъул кечI лIугьунареб. Къалмицца хъваге, гIакълуялълъ хъвай. Къалмицца хъвараб гIощтIоцца къотIулареб. Къалъизеган гIадамалгун къаццандулев, къалъудасса нахъе Аллагьгун къаццандулев. КъалъичIого къо беццуге, къинлъичIого нус еццуге. Къан зарукьги ккогейила, квер биххунги биччагейила. Къан хIамил рачIчI чIчIолареб, рахъдал гьабун чед чIчIолареб. Къан цIцIуледухъ виччизеги вукIунге, векиледухъ вакъвазеги вукIунге. Къани зарукьеги унев, виччан тани дунялги цIолев. Къанщарал беракьа чи нечоларев. Къараб квер рагьуларев, къараб нуцIцIа ричIуларев. Къараб нуцIцIидаги – анцIго бер, рахараб рукъалдаги – нусго гIин. Къарассда гурони, заз унтуларо, ккарассда гурони, рокьи лъаларо. Къарз босулеб къоялълъ – гьоцIцIокIал, бецIизе ккараб къоялълъ – букIкIараб нодо. Къарз ваццассеги гьабуге, гьоркьоблъи хунгутIизе. Къарзалълъе жо кьей – рокьи къотIулеб кIвекьмахх гIадаб жо. Къаркъала бугъилав, ракI хIанчIчIилав. Къаркъала турула, лълъикIлъи холаро. Къаркъала херлъаниги, ракI херлъулареб (Дун жеги бахIарго бугилан абурабила ракIалълъ. Бугищан бихьизе цо дихъ балагьеян абурабила къаркъалаялълъ). Къарумав мадугьалассдассаги цIунаги, рекIел гьава кIудияв мискинчияссдассаги цIунаги! Къарумассул боцIцIи ирга щоларесс кунеб. Къарумассул квер къараб – кIал рагьараб, саххаватассул кIал къараб – квер рагьараб. Къарумассулгун даранги гьабуге, къохIехьоларессда цадахъ кьалдеги унге. КъартI гьечIей яс – рас гьечIеб бетIер. Къассд бихьун, гIамалила, гIамал бихьун, хIалтIийила. Къасси бусада лъечIеб бетIер радал тIаде борххизе батулареб. Къасси вахъун, къад кьижун, рузил гIамал жибго те. Къасси лъолеб тIагъур къадги лъоге, къад лъолеб тIагъур къассиги лъоге. Къасси роцIцIун, къад кьерхун – хуруе балагь, херав чиясс бахIарай чIчIужу ячин – рукъалълъе балагь. КъатIраби данделъунила лълъадал ралъад лIугьунеб. КъачIеб ххариниб ххер бижуларо. Къвакъвай – хъазил, хоно – къурщил. Къвали бахъулаго, тIилал тIехIарав, ТIин-хоро кунаго, кIал гIурччинлъарав. КъваригIани ахIизе ХIохьочида цIцIар лъала. КъваригIараб меххалълъ – КъурамухIума, къваригIинчIеб меххалълъ – Бабал МухIума. КъваригIел гьечIого гIегIедараб хIелеко царал кIалдибе ккарабила. КъваригIел гьечIого хIапулеб гьой ххеххго херлъулеб. КъваригIел ккун, ахIулеб меххалълъ – ХIажимурадил Давуд; къваригIел гьечIеб меххалълъ – ХIанкIил Давуд. КъваригIинарилан ккараб жо цо къоялълъ къваригIунеб. КъваригIинарила анцIго рукъалълъе къого гьобо. КъваригIинчIеб босани, къваригIараб бичизе ккола. Къварилъи бихьичIессда гIатIилъиялълъул къимат лъалареб. Къварилъи бищун ццебе къобухIаралълъубейила бачIунеб. Къварилъи кидаго букIунареб, гьеб хисизе гIатIилъи бачIунеб. Къварилъи ккарасс цохIо бугеб оц хъвелиланги абулебила. Къварилъи ккедалила чи лъалев. Къварилъиги къадарги къед борлIунги рачIунелила. КъватIиб гьури-муч кIудияв, рокъоб, оц тIурани, лIарада базе жо гьечIев. КъватIиб чан гьабуни, чи гьалаглъулев. КъватIиве ккараб меххалълъ къватIулжо гIадин вукIа. КъватIисса чIчIужу ячани, рукъалда асскIоб рукъ букIунаро, хуралда асскIоб хур букIунаро. КъватIисса чIчIужу ячани, таргьида рухьен биццатаб базе кколебила. КъватIисса чIчIужу ячарав чи – нух бичун босарав чи. КъватIисса щолеб гIарацалдасса рокъоб щолеб пахьго лълъикI. КъватIул цIцIогьор кIулаз кколевила, рукъалълъул цIцIогьор ссунццаго кколаревила. КъвачIа ххун къо – лълъикIаб къо, нахъияб къо – квешаб къо. КъвачIида рекъараб рукъи камулареб. КъвачIил кIал бухьунареб. КъвачIил ххеней барай, хведрал цIа барай. КъвачитIа къачIони, гьиритIа букIунареб. Къади чIвалароанила, къасси бетIер къаданижоялда лъун букIарабани. СардилI Шайиххил МухIумида рагIулеб букIун буго гIадамазул гара-чIвари, рихха-ххочарал гьаркьал. МухIумил нуцIцIидаги кIутIун, цоясс абун буго: - Мун щай тIаде вахъунарев? Дур мадугьал Къади чIван вуго! НуцIцIида тункарассе Шайиххил МухIумицца кицилъун лIугьарал гьадал рагIабаздалъун жаваб кьун буго. Къебедассул квер меседил, кочIохъанассул рагIи меседил. Къед биххараб меххалълъ бахъинчIеб хIур нахъа бахъунареб. Къеллеб ракьа квараб гьой ГьидалI чIчIолареб (КъватIиссан щвараб ххинкI гьуинлъарав чи рокъов чIчIоларев). КъелI хъазан речIчIараб къо бачIунгеги. Къечон гуребила чIагIа гьекъолеб. Къечедал гуребила гъуй бухъулеб. Къимат кьезе гIедегIуге, гIадан дуе ралъад гурев. Къинаб квер хIорго тани, хIажатаб жо щолареб (Къинал кверал хIор гьарун, хIалихьалъи баччуге). Къинлъуларей чIчIужуялдасса къинлъулеб гIанкIуго лълъикIила. Къинлъун хоно гуреб, хун гьан гуреб. Къисматги къадарги къед борлIунги бачIунебила. Къирбалалъул гьури – кьерхадул ццебехъан, тIассагьури – квачалълъул ццебехъан. Къо арабгIан лъалареб лъагIелги букIунеб, лъагIелгIан ххалатаб къоги букIунеб. Къо бихьичIессул чи лIугьунарев. Къо бихьичIого щвараб бечелъи гьороцца унебила. Къо бихьичIого щвараб боцIцIи хIехьоларебила. Къо бихьун щвараб гъурущ къо бихьичIого щвараб туменалдасса къиматаб. Къо бихьун щварабгIан ххинкI гьуинабила. Къо бихьунила меседо гьинде яхуней. Къо гьечIебани, сардил бецIлъи лъалароан. Къо гьечIелълъуб асс гьечIеб. Къо кинаб букIарабали пикру къасси гьабе. Къо ккани, къоркъолги бацI лIугьунебила. Къого бихьичIого чилъи бокьарасс, ярагъго гьечIого, рагъде къассд гьабе. Къойил гъеду ахIданиги, бачIунаребила их, цо къоялълъ гагу ахIдани, бачIунебила. Къойилго букIунаан дун анибилан абурабила хIамицца. Жакъа гурони жиб тIаде ккечIилан абурабила бацIицца. ХхарибакIалда кваналеб хIамида тIаде ккун буго бацI. Гьеб чIвазе багьанаги балагьун, бацI хIамиде хъихъидун буго: мун гьаниб щиб гьабулебин, лълъиццайин мун гьанибе биччарабилан. ХIамицца гIила бачун буго: къойилго букIунеб, жиндир ругьунаб бакI бугин гьабилан. Жакъа гурони жиб тIаде ккечIилан, бацIицца хIама чIван буго. Кици хIалтIизабула щибаб къоялълъ гьабулеб ххиянат цо къолъялъ къватIиб чIвала абураб магIнаялдаги. Къокъид арав ххутIарав, ххалат арав вуссарав (Къокъиднухалълъ арав вуссинчIевила, шагьраялълъ арав вуссаравила). Къойил шагьи нахъе реххе, къваригIараб къоялълъ чияда ццебе хъат ккунгутIизе. Къолев чияссдасса бергьиналдасса бергьунев чияссдасса къейго лълъикIаб. Къолол гьаркьида бараб букIуна кьурдухъанассул хIатIил роси. Къолол дагIба бани, ссахIил ххайир кколеб (боххил дагIба бани, ратIагIаги камулареб). Къориниб бугеб анцIгоялдасса къвачIиниб бугеб цо лълъикIаб. Къоркъоцца тIанчIие рецц-бакъ гьабулебила: гьел дур беразулги берцинлъийила, тIомолги гьайбалъийила, кIварщалълъулги ххалалъийила. Къорола эххеде бахин – роцIцIадул гIаламат, гIодобе бачIин – кьерхадул гIаламат. Къоролав чIчIужу абизе витIуларев. Къоролалълъ хьихьараб гIакаги босуге, къоролалълъ куцарай ясги ячунге. Къоролалълъ хьихьарав васасс къо хIехьолареб. Къоролалълъул макруялдасса цIунаги. Къоролалълъул ракI – ихдалил къо (Къоролалълъул ракI ихдалил къо гIадин хисардулебила). Къоролалълъул рокъоб гIураб катицца гIункIкI кколаребила. Къоролалълъул хIал къоролалда гурони бичIчIулареб. Къоролалълъул чехь мугъ ссверунги букIунеб. Къосунаревила мурид, къосине ккани, цIакъго къосуневила. КъотIи тIубаларессда асскIовеги къаге, баркала лъаларессе кумекги гьабуге. КъотIноб хIарщ букIунилан, хIама рокъоб толареб. КъохIехьеялъила иш гьабулеб. Къохьол шарбал ретIарав, къадкил хьалбал гьарурав. КъочIчIолIе гIебу гIадин Къоялълъги ассалълъги къадарлъи баххчулареб. Къоял тIагIун, киналго холел, анищ тIагIун, щивго холарев. Къуват бугев гуревила кутакав, ццин бахъараб меххалълъ гьеб къулчIчIизе кIолевила кутакав. Къуват бугелълъуб ссабру цIцIикIкIараб, ссабру цIцIикIкIарассул гIумру ххалатаб. Къуват къезабулеб къуват гIемер бугеб, ххалкъалълъул къуват ссунццаго къезабулареб. Къуватав цояссдасса бергьунев, цIцIодорав анцIгояссдасса бергьунев. Къуваталдасса гIакълу бергьунеб. Къуватассе хIелулев, хIал бугессе къулулев. Къуватассул ссабру букIуна, ссабруялълъул кIодолъи букIуна. Къулизе лъарассда ворххизеги лъала. Къулиладаян могьода гьикъарай, къотIиладаян сумалда гьи - къарай. Къулилалде воржунге. КъуличIого ворххуге, чIамичIого къулчIуге. КъуличIони ворххизе кIолареб. КъулчIчIизе кIолареб жо хIанчIуге. КъулчΙчIилалде цΙцIудуцца ракьа роццалда борцунебила. Къун вачIиналдасса хун вачIин лълъикIаб. КъулчIчIун эххебеги унареб, аххун къватIибеги бачIунареб. Къунмухьиде кьунилан ябучу босуге: бо бахъаралълъув нахъа ххутIула. Къураб бакIалде ццин ххеххабила. Къурассде ворта, хIалхвад! Къурассул рекIел унти – бергьарав чIвалеб чIор. Къурбандил МухIумицца катида ниха гIадин. Къурбандил МухIумида мадугьаласс бицун буго жиндир катицца гьан кунарин, щиб кьуниги чIухIдарулилан. Къурбандил МухIумицца абун буго жиндир катиццани нихагицин кунилан. Мадугьаласс гьарун буго, бегьулеб батани, жиндир кетоги кьураб квен кваназе ругьун гьабеян. Чанго къоялълъ МухIумицца мадугьалассул кето х1обода бухьун буго. Цинги, ххадув чиги витIун ахIун вачIарав мадугьалги валагьун, гьелда ццебе хъат цIураб ниха бан буго. Бакъараб катиццаги гьеб, цо мугь течого, кванан буго.

  • z | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Сс S Ссабру алжаналълъул кIулила. Ссабру гьабулеб бугилан чи валъаргъунге, си гIураб меххалълъ, биххулебин. Ссабру гьаби гIоларо, рекIелI гIакълу гьечIони. Ссабру гьабурассе пайда кIудияб. Ссабру гьечIев чияссул гьабун жо релълъунаро. Ссабру – гIакълуялълъул ххан. КIудияв чиясс васассул васассда малълъулеб букIун буго, ворехха, дир вас, мун ххеххдаруге, гIакълуялълъул ххан ссабруйин кколеб. ЧIчIужу ячун мехх бахъилалдего, гьев ккун вуго рагъде. Рокъове щвечIого, ун руго гIемерал санал. Гьасс пикру гьабулеб букIун буго чIчIужу жиндие ххияналъанадай, россассе анадайилан... Аххирги гьав щун вуго сардилI жиндирго минаялде. Цин рокъове лIугьиналде, тIохдеги вахун, ццебетIалаялдассан рокъове валагьараб меххалълъ, бихьун буго таххида вегун цо бихьинчи вукIинги, гьессул бетIералда кверги лъун, жиндирго чIчIужу йикIинги. КIудияв инссул малълъ босичIев ххеххдарухъанасс, жанивеги лIугьун, цин хханжар кьабун буго бихьинчияссда, ракIалда букIун буго чIчIужуги чIвазе. «Вай! ЧIвана гури дуцца дурго унтарав вас!» – ан чIчIужу тIад ххурххараб меххалълъ, бичIчIун буго гьессда ссабру гIакълуялълъул ххан букIин. Ссабру тIагIарассухъа тIад гьабун жо босуге. Ссабру ццебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе. Ссабруялда чIчIарассе пайда камулареб, ххеххдарухъанассул ххиялал хIорго ххутIулел. Ссабруялълъ мегIер лълъухъалеб. Ссабруялълъул тIиналда – багIараб месед. Ссабуралълъул аххада - роххел. Ссабруялълъул тIиналда тIогьол майдан рагIула. Ссабурассе – бохх, виххарассе – ратIа. Ссадакъа кье кваранаб квералълъ, кьураблъи квегIаб квералда лъаларедухъ. (Квараналълъ кьураб квегIалда лъазе кколареб). Ссадакъа кье рукъ бакъулареб, хIалтIи гьабе черхх чIвалареб. Ссадакъаги къадеквенги – дагьаб жо. Ссадакъаялълъ хьихьулессул къадруги букIинаро, бараб гIетIалълъ тIувалессул къиматги хвеларо. СсахIие жо рокъоб гьечIей, къолоде жо тIад ретIуней. СсахIил пайда гьабулаго, къолол зарал ккарабила. СсахIилги роцен лъазе ккола. СсахIихъ ссахI гурони щолареб. СсахIицца къеларо, къолоцца бергьинаро (Жо гуреб жоялълъул бицунге). СсахIицца хIама цIцIараб, рахъицца оц цIцIараб (хIал щун, унтараб). Ссвакарассда нух гурхIулареб, вакъарассда чед гурхIулареб. СсваквачIого чIчIани, чIчIечIого вилълъине кколев. Ссванилан ккараб цIа рекIинеги бегьулеб, ссванилан тараб питна цIилъизеги бегьулеб. Ссвараб ххвалчен, чарххида ккуни, рекIуна; гIантав чияссулги, гIадамалълъе вахъани, мадар лIугьуна. Ссверун къачIеб азбар – цаби гьечIеб кIал. СсалихIицца жергъен гIадин, рекъезабе. Ссан – дуе, хур – дие, бекьизе – дуе, кваназе – дие. СсанкIиний лъуниги, чIчIужугIадан цIунун бажаруларей. СсогIаб чу бичула, квегъуд буссунареб бугъа хъола. Малълъараб гьабуларей чIчIужуялда щиб гьабилеб? СсугъралIа чиясс гьабураб жо анкьго соналдассан гурони тIатунаребила. Ссугъур къан букъе, къехь биччан букъе. Ссундуе букIаниги, пал лълъикIаб къотIе. Ссундуего жиндир заман, ххасало-гIазу, риидал-цIцIад. СсундулIго роцен букIине кколеб. Ссундулго аххир букIунеб, анищалълъул бицен ххутIулеб. Ссургу гIадинги вукIунгейила, жини гIадинги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила (Ссургу гIадин хъалалъанги вукIунгейила, жини гIадин гъорлIанги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила). Ссуриялдасса хвелго лълъикIила. Ссурун хвей – кIицIцIул хвей.

  • gh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Ч x 1. Чабхъадул боцIцIи чабхъацца унеб. 2. ЧагIиги чIвачIого, чуги хвечIого, хъала бахъулареб. 3. Чадикълъи бихьаниги, чиякълъи бихьугеги. 4. Чадил къимат гьабичIессда къо квешаб бихьулеб. 5. Чадихъ гьан бичарав, дур чара хваяв, Чохьоцца реххарав, дур чилъи хваяв. 6. Чадицца цIунилилан цIцIодорлъи гIодоб тоге. 7. Чали гъазихъацца кколеб, гъарим пакъирасс кколев. 8. Чалуххай чIчIужу россассеги йокьулейила, росдаеги йокьулейила. 9. Чан батIияв, чан тIекъав, чан гIажизав, чан гIабдал. 10. Чан бахIарчи къосарав кухIлу бугел бераца, каранзул кIичIал ричIун, жаниве ваккизегIан. Чан меседу къосарай, къачIарал васал рихьун, къвал байдал, борохь батун, хьолбода жемизегIан. 11. Чан боцIцIи гьечIев гIалим гIодов ххутIарав, чан боцIцIи гIемерав гIабдал гIаршалде вахарав. 12. Чан гьабизе бигьаяб жо буго, чилъи гьабизе захIматаб буго. 13. Чан гьитIинаб бетIералълъ кIудияб бетIер къотIараб, чан гьитIинаб къукъа кIудиялдасса бергьараб! 14. Чан гIакъил вугев гIабдалассул малълъалда гъоркь! 15. Чан гIалимассул гIелму мискинлъиялълъ каранда жаниб ххутIараб! 16. Чан жагьилав гIабдал боцIцIуцца жаниве вачарав! 17. Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасса чи тIурулеб, чан зарараб жо бугеб, жиб тун чи вукIунареб. 18. Чанаре рачиналде гьаби кваназаруларел. 19. Чанахъанассул гьан биццатаб, гьабигьанассул чед биццатаб. 20. Чанахъанассул пишаялда баракат букIунареб. 21. Чангит барабщинаб чу букIунаро, чухъа ретIанщинав чи вукIунаро. 22. Чанго бихьичIого, рохьобе туманкI (ГIила гьечIого чияда гIайиб чIваге). 23. Чание мегIер лълъикIаб, чодуе авлахъ лълъикIаб. 24. Чанил бице чанахъанассе, чол бице чотIахъанассе. 25. Чаницца кьуру тун буго. 26. ЧанцIцIул борцаниги, хIамил рачIалда цого натIила. 27. Чара хвани, лочноцца гъадилгун чан гьабула. 28. Чаран къвакIула бацIанагIан, бахIарчиясс къо хIехьола хIал цIцIикIкIанагIан. 29. Чаран мугъалде ккун буго. 30. Чаранги биунеб, цIел хIал батани, гамущги меххтулеб, гIемер гьекъани. 31. Чаргъеду парххунилан, бакъул нур ссвинаро. 32. Чарухъаз гьабун, чакмабаз кваналеб заман бачIун буго. 33. Чахъаби ругони, вехь камиларо. 34. Чахъабиги цIунун, бацIалги гIорцIцIун. 35. Чахъдал къинлъиялдасса куйдул багьлъи бергьунеб. 36. Чахъдал тIом ретIараб чакъал гIемераб. 37. Чахъдал цIцIолъи бихьидал, цIцIе белъарабила. 38. Чахъдацца цIцIараб цIцIеде бачунге. 39. Чахъу гIорцIцIулареб, гIорцIен къинлъулареб. 40. Чахъу чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги багIарабила. 41. Чванта тIадагьлъани, гьудулзаби дагьлъулел. 42. Чвантида кIулал рарав. 43. Чвантиниб гIарац бугони, магIардаги ах гьабулеб. 44. Чвантиниб гIарац бугони, эбелалълъул къвалакьа яхъунги, яс кьолейила. 45. Чвантиниб гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIащтIи кодоб гьечIого, рохьове инго лълъикIаб. 46. Чвантиниб месед бугони, росулI яс камуларо. 47. Чваххулеб лълъадае нух камулареб. 48. Чваххун балеб цIцIад гIадав, щун бачIунеб гIор гIадав. 49. Черхх херлъаниги, ракI херлъулареб. 50. Черххалда гIакъуба бихьичIони, чехьалда рахIат бихьулареб. 51. Черххалда ракI чIчIоге, чи данде ккезе гурин! 52. Черххалда хIур бахинчIони, хIарччида нах бахунареб. 53. Черххалдасса гIорцIцIуге, къуваталдасса чIухIуге. 54. Черххалълъул цIцIайи цIцIадирабаз бицуна, чилъиялълъул цIцIайи мацIцIалълъ бицуна. 55. Чехь бакъарав, рукъ мискинав – умумузул къо-ассалдаса чIухIарав. 56. Чехь бакъунилан, рукъи балареб. 57. Чехь бухIуларессде рекIел ургъел бикьуге. 58. Чехь бухIун гIодани, беццаб бадиссаги магIу бачIунеб. 59. Чехь бухIун ракIалда ккураб жо киданиги кIочонареб. 60. Чехь гIорцIцIаниги, бер гIорцIцIуларев. 61. Чехь гIорцIцIарав – бер бакъарав, рукъ бечедав – ракI мискинав. 62. Чехь квешай кIалалълъе ккогеги, кIал квешай мадугьалихъе ккогеги. 63. Чехь квешасс рукъги бичулеб, ракI квешасс боги бичулеб. 64. Чехь сабаблъун бетIер ссуризе тогейила. 65. Чехь сабаблъун бетIер хварав бетIеркъотI. 66. Чехь цIезегIан кванаялълъ кIкIухIаллъи тIад гьабулеб. 67. Чехь чIвалеб жо – квен, черхх чIвалеб жо – рахIат. 68. Чехьалда рихараб жо нус гурони гьечIебила. 69. Чехьалълъ бетIер какарав бетIеркъотI. 70. Чехьалъеги черххалъеги бокьанщинаб гьабуни, чи бокьове ккола. 71. Чи вихьун, квен кьурал, чу бихьун, хер кьурал. 72. Чи вихьун, чухъа гьабе, гьудул вихьун, ракI рагье. 73. Чи вуххуге – малълъе, чу буххуге – кIалцIи бай. 74. Чи гурессда гьаруге, дурго хIурмат хунгутIизе. 75. Чи гьечIелълъув гIакъиллъун вукIиналдасса гIадамазда гъорлI гIабдаллъун вукIинго лълъикIила. 76. Чи гIемер – чи дагь, чу гIемер – чи дагь (Нагагь гурони, чу батуларо, надир гурони, чи ватуларо). 77. Чи гIемералълъуб гIакълу цIцIикIкIараб. 78. Чи гIемерлъани, гIадлу холеб. 79. Чи даражаялде, захIмат бихьун, вахунев, гIодове бигьаго кколев. 80. Чи къварид гьавурав воххун ххутIуларев. 81. Чи лъала рагIудассан, чу лъала рилълъадассан. 82. Чи лъазе бокьани, гьессие хIакимлъи кьейила. 83. Чи лъазе бокьани, гьессул гьалмагъассухъ ралагьейила (Чи лъазе бокьан, гьудул цIеххе). 84. Чи лъалилан абуге, лъороб гьецIцIо батизе гурин. 85. Чи чохьоццайила мискин гьавулев. 86. Чи хвезе бегьулев жинда чилъун вихьуларев чияссдассанги, чи хвезе бегьулев жинда жолъун бихьулареб унтиялдассанги. 87. Чи чIваларилан кьалги гьабуге, чу ссвакаларилан ахIудги рахъунге. 88. Чи чIван, балагьги бачIунгеги, чияда ццере къулизе ккарал къоялги рачIунгеги. 89. Чидай хIелиялдасса вакъи рекъон букIуна, яхI тун хьвадиялдасса къадру рекъон бихьула. 90. Чилъун лIугьине гIумруги дагьаб. 91. Чилъун лIугьинеялдасса гІалимчилъун вахъине бигьаябила. 92. Чини лъалин, ракI лълъида бихьулеб? 93. Чирахъ баканиги, чIчIужугIадан гьечIеб рукъалда нур букIунаребила. 94. Чирахъ гьечIеб рукъ – хIайван гьечIеб бокь. 95. Чирахъул канлъи гIоларессе бакъул канлъиги гIолареб. 96. Чияда базе бигьаяб жойила зигара. 97. Чияда бицараб жо – росдадаго лъараб жо. 98. Чияда божараб карщ лълъамияб букIуна. 99. Чияда велъуге, дудаго бадибчIвай бихьизе гурин. 100. Чияда гьардоге, дуццаго гьабе, гIедегIуге, лълъикI гьабе. 101. Чияда гьикъарав – гIакъил, гIакъилассда нахъвилълъарав – цIцIодор. 102. Чияда гьикъаралълъе дуцца жаваб кьоге - «ГьикъичIогобиц», – ан дудаго цIцIар лъолеб. 103. Чияда зигара базе инчIев жиндирго къварилъигун ххутIулев. 104. Чияда кверщел гьабизе лIугьарав лълъиего вокьуларевила. 105. Чияда ццебе хъат кквеялдасса хъирул къоно тIад байго лълъикIаб. 106. Чияда ццебе хъат ккурасс черхх бичула, чияе наку чIварасс намус бичула. 107. Чияда – цедер, дудаго – рокьо. 108. Чиядасса тIокIлъарассул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар бугев ххашазе тушманлъула. 109. Чияде абулелълъул, дурго эбелалълъулги пикру гьабе. 110. Чияде хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб. 111. Чияе бухъаралълъуре нилIго кколел. 112. Чияе гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек. 113. Чияе гьересси бицарасс дуеги бицунеб, чияе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб. Искандар Зулкъарнайидаги Дарвануш абулев хханассдаги гьоркьор ккаралила кIикъого къоялълъ гьоркьосса къотIичIел роркьарал рагъал. Дандеяссул къуват цIцIикIкIараб меххалълъ, Искандар хIилаялълъе ургъизе ккаравила. Искандарицца, цIцIикIкIараб къадар гIарац-месед кьезе къотIиги гьабун, Дарванушил кквезе щварав божарав гьалмагъ тIамуравила гьессда хвалил ругънал лъезе. Боги биххун гъоркь ххутIарав Дарвануш хханассда Искандарицца абурабила - «Рецц Аллагьассе, дир квердассан гурев, дурго бищун божарав гьалмагъассул квердассан мун холев вукIин!». Дарванушица абурабила - «Дун дуда тIасса лIугьана, лълъикIав бахIарчи, диени ххиянат гьабурасс дуеги ххиянат гьабизе бугебхха!». ГьебсагIаталълъго Искандарицца ххиянатчи гьессул хханассда ццевеги вачун чIваравила. 114. Чияе ккараб къварилъиялдасса воххарав ххалат воххун ххутIуларев. 115. Чияе нассихIат гьабун, дуццаго мунагь гьабуге. 116. Чияе рагIи бицунге, бицун ххадуб хвезе тоге. 117. Чияе хвел гьаричIого, дуего гIумру гьаре. 118. Чияеги гьабе, дуего гьабизеги кIочон тоге. 119. Чиякъасс ургъел катиде бикьулеб, вехьасс ургъел гьойде бикьулеб. 120. Чиякълъиялдасса чадикълъи лълъикIаб. 121. Чиякълъун чи ххутIугеги. 122. Чиякьа мунго къезе ххиянат гьабуге. 123. Чиякье кIалги ккоге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гьоркьоссанги раккуге. 124. Чияр бадибе унеб рас бихьулев, жиндирго бадибе унеб чIалу бихьуларев. 125. Чияр бакI бихьичIого, нилIералълъулго къимат лъалареб. 126. Чияр бакIалде араб лочнол нилIерго бакIалда бугеб гъадилгIан къимат букIунареб. 127. Чияр бахъухъалдасса нилIерго ххинкI лълъикIабила. 128. Чияр бихьизе – канав, жиндирго бихьизе – беццав. 129. Чияр бицин буго чияр гьан кванай. 130. Чияр бициналде дургоги пикру гьабе. 131. Чияр боцIцIиялда баххиллъизе бегьулареб. 132. Чияр боцIцIутIа бер биххуге. 133. Чияр васассдасса нилIерго яс лълъикI. 134. Чияр гьанадасса нилIерго гьуэр лълъикIаб. 135. Чияр гьорохъе кьурдуге. 136. Чияр гIадалI къараб чIор – гIеркъилI къараб чIор. 137. Чияр гIайиб ккола бачIараб балагь, нилIер гIайиб ккола бачараб балагь. 138. Чияр гIайибал рицунелълъул, мукъулукъ гIатIидав, жиндирго гIайибал рицунелълъул, гIундул раххчулев. 139. Чияр гIакълу босулареб бетIералдассаги цIунаги, бетIер гьечIей чIчIужуялдассаги цIунаги. 140. Чияр гIачIар какилалде, нилIерго басидулги багьа гьабе. 141. Чияр жо бикъарассул квер цIцIогьорабила, чияр жо ккурассул кверги кIалги цIцIогьорабила. 142. Чияр жо чияе те. 143. Чияр квен гьуинав, чвантил кIал къваридав. 144. Чияр квен гьуинлъугеги, чияр рукъ гьуинлъугеги. 145. Чияр кверацца мичIчI бетIизе бигьаяб жойила. 146. Чияр квеш бихьараб тезе кIваги. 147. Чияр кумекалде хьул лъоге, хIалтIун балагье. 148. Чияр куц-бегIалълъул бициналде цин матIуялълъуве валагье. 149. Чияр къварилъи жиндего бачIиндалила бичIчIулеб. 150. ЧIияр къимат гьабуларесс жиндиргоги гьабулареб. 151. Чияр кIиго шагьи ккурав чияссул багьа – кIиго кепек. 152. Чияр мажгиталълъуб как ахIулареб. 153. Чияр маслихIаталълъ росс-лълъади рекъон чIчIоларо, гъоркьагьобоги тIассагьобоги гIадин, цоцалI ххенон, жалго рекъон ккани гурони. 154. Чияр мегеж кквелалде, дургояб къунцIейила. 155. Чияр нахуде хьул лъун, нахударахъал гьаруге. 156. Чияр оц кваналевилан дирго ссан кваналев ватана. 157. Чияр рагIи – тIохде балеб цIцIад (РагIи – къватIиб, дун – рокъов). 158. Чияр ракьалда хханлъун вукIинегIан, нилIерго ракьалда узденлъун вукIинго лълъикI. 159. Чияр ракьалда чи беццав. 160. Чияр ракI релъиледухъ, накуги чIваге, чи чилъун вихьичIого, гьаваялдеги вахунге. 161. Чияр ригьиналда гьоркьове, гIабдал гурони, лIугьунаревила. 162. Чияр риди рахьилан ккогеги, рагьтIа гIака гьечIого ххутIугеги. 163. Чияр рокъоб квен тIагIамабила. 164. Чияр рокъов вугониги, чи лъала, чияда гъоркь бугониги, чу лъала. 165. Чияр рокъов дегIенлъунги вукIунге, дурго рокъов цIцIелъунги вукIунге. 166. Чияр ролIул чедалдасса нилIерго мочол гурга лълъикIаб. 167. Чияр ссадакъаялде саххаватго хьвадулев, жинццаго къватIибеххун къараб гурга кьоларев. 168. Чияр ссурукъ бихьараб дуццаго гьабуге. 169. Чияр тIагъур бахъани, нилIерабго къвалакь кквезе ккола. 170. Чияр хурибе рак баге. 171. Чияр цIакъалдасса нилIерго къадараб лълъикIаб. 172. Чияр цIцIоб батуларо, лълъадал нах бахъуларо. 173. Чияр цIцIоб – лълъадал щар. 174. Чияр цIцIобалде ккогеги. 175. Чияр чода рекIарав ххеххго рещтIуневила. 176. Чияр чода рекIарав хIарщукъотIнов рещтIунев. 177. Чияр чороклъи бихьизабулеб килищ бацIцIадаб букIине ккола. 178. Чияр чурпадулIе цIцIам жинццаго тIамизе те. 179. Чияр чIчIужу берцинайила, чияр чу цIакъабила. 180. Чияраб ссурун бихьун, нилIго кантIаги. 181. Чияралда бер биххарав, жиндирабго цагъриниб лъурав. 182. Чияралда хъваге, дурабго цIуне. 183. Чияразул бицунаго, дургоязулги пикру гьабе. 184. Чияргун гIахьалаб гIаладай, дунго бетIергьанаб хIамадай? 185. Чиясс дуе лълъикIлъи гьабуниги, квешлъи гьабуниги, гьелда нахъа цо гъваца батулебила. 186. Чиясс чи кIодо гьавуни, кIиялго кIодолъулел; чиясс чи инжит гьавуни, кIиялго инжилъулел. 187. Чияссда рекъаралила ишалги рукІунел. 188. Чияссдасса гьессул рагIад ххалатабила, гьессул гьунаралдасса рецц-бакъ борххатабила. 189. Чияссе гьабураб лълъикIлъиялдасса кIудияб ссадакъа гьечIебила. 190. Чияссе – гIамал берцинлъи, къохьое – нах, ратIлие – цIуни. 191. Чияссе – рагIи, хIамие – тIил. 192. Чияссе ссундулго гIей гьечIебила. 193. Чияссул бахIарчилъи борохь чIвазеги къваригIунеб. 194. Чияссул бахIарчилъи – ссабру гьабизе кIвей. 195. Чияссул чилъи жиндирго хъатикь букIунеб. 196. Чияссул гIамал хIакимлъун ккедалила лъалеб. 197. Чияссул ияхI – носол бал гIадаб жо. 198. Чияссул квешаб гIамал бахунеб унтиялдасса квешаб. 199. Чияссул къунтIаб гIамал-ххассият цо рагIудассанги бичIчIулеб. 200. Чияссул кьучIлъи – рагIи, рагIул кьучIлъи – тIубай. 201. Чияссул кIодолъи рарал соназулI гуребила букIунеб, гIакълуялълъулIила. 202. Чияссул хвел чияда бараб гьечIеб. 203. Чияссул хвелгицин берцинаб букIине ккола. 204. Чияссул тушманила жиндаго лъалареб жо. 205. Чияхъе тIагIел кьезе рокъотел виччай. 206. Чияцца гьабичIелълъул бициналде, дуццаго гьабуралълъулги багьа гьабе. 207. Чияцца гьабуралълъе къимат кьезе цIакъ бигьаяб жойила. 208. Чияцца гьабуралълъул гурони, жинццаго гьабуралълъул рогьо букIунарев. 209. Чияцца гьавун, чи лIугьунарев, жинццаго живго лIугьинавизе кколев. 210. Чияцца гьумер бухIизегIан, цIадуцца мегеж чIурхIаги. 211. Чияцца гIакълу малълъун, гIабдал цIцIодорлъуларо. 212. Чияцца кьураб бищунго лълъикIаб жо – гьáричIого кьураб жо. 213. Чияцца кьураб жа гьекъеялдасса живго бетIергьанаб лълъадал рагI гьекъей лълъикIаб. 214. Чияцца чи инжит гьавуларо, цин жинццаго живго инжит гьавичIони. 215. Чияццаниги кваналел Хъилидал багIаргIечал нилIеццаго кванан лълъикIила. 216. Чода рекъаралила тIукъбиги чIвалел. 217. Чода чIвалел магIазул гъанссида чIвалел магIал гьарурав Аллагь! Маххукъебедассул йикIун йиго цIакъ берцинай чIчIужу. Хханассе бокьун буго, гьелълъул россги тIагIинавун, жинццаго гьелдассан кеп босизе. Хханасс лъазабун буго къебедассда, метер радалалде нусго чодуе тIикъва-магI къотIичIони, жинцца мун чIвазе вугилан. Маххукъебедасс рокьукъаб ххабар чIчIужуялълъе бицун буго, кIвелародай рухI ххвассар гьабизеян хIалтIизе къассдги гьабун буго. ГIакъилай чIчIужуялълъ гьессда абун буго - дудассан тIалаб гьабулеб буго инсанассухъан гьабун бажарулареб жо. РачIа, къасси нилI регилин, метералде щиб бугониги ккелеб батила. Цониги магIги къотIичIого, росс-лълъади регун руго. Радакь, нуцIцIидаги тункун, хханассул нукарасс абун буго - «Ххан хун вуго, ххеххго гьессул гъанссида чIвазе магIал къотIизе тIаде вахъа», – ян. Маххукъебедасс гьурмада квер бахъун буго, ццереххун реххссарал рагIабиги абулаго, гъанссида чIвазе магIалги гьарун руго. 218. Чодасса гьоко ццебе унеб. 219. Чодасса рещтIун, хIамида рекIун. 220. Чодуе – цIцIал, хIамие – хIенссеркIо. 221. Чое – кьили, хIамие – гъалдибер. 222. Чое хъулухъ гьабичIони, лъелго рилълъине ккола, хIама лълъикI хьихьичIони, рохь мугъалълъ баччизе ккола. 223. Чол жал кколебилан, хIамил рачIчI ккоге. 224. Чол къимат лъаларев лъелго вилълъине кколев. 225. Чол хIал, гъогъолIе бачани, лъала, чияссул хIал, сапаралде цадахъ ккани, лъала. 226. Чордезе бокьарав лълъекьа хIинкъуларев, хIалтIи бокьулев бокьун вегуларев. 227. Чорххое рахIат гIемер гьабурав нахъа воххуларо. 228. Чорххол гьава цIцIикIкIарав цо хIалалда ххутIуларо. 229. Чорххол гIамал хисугеги, рекIел гIадлу биххугеги. 230. Чорххол гIамал хисугеги, хурул талихI бекугеги. 231. Чорххол сахлъи бараб буго роццада кванаялда, рукъалълъул ракIа-раххари – босаралълъуб босараб лъеялда. 232. Чорххол тIабигIат буго, керен тIуни, батIалъун чIчIолеб, тIечIони, кидаго хахулеб лъимер гIадаб жо. 233. ЧорххолI бугонани, нилIерго рухIги, махIалда бугони, нилIерго хIалги. 234. ЧорххолI бугони – рухI, чвантиниб бугони – гIарац. 235. ЧорххолI бугони – хIал, рокъоб бугони – махIал. 236. ЧорххолI витIарассе кинабго квен татуяб. 237. ЧорххолI витIи гIадаб чода чи рекIунарев. 238. ЧорххолI гьечIеб гьунаралълъ чи ццеве тIун инаро. 239. ЧотIахъанасс чу беццулеб, векьарухъанасс оц беццулеб. 240. Чохьое ияхI гьечIев, ракъуе ссабру гьечIев. 241. Чохьоеги рихьиеги бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколел. 242. Чохьол бухIиялда щибго релълъунареб. 243. Чохьол гурони, мацIцI лъаларев, чадил гурони, бицунарев. 244. Чохьол гьудулзаби чанги ратулел, къваригIиндал гьудул дагьав ватулев. 245. Чохьол дару – гьан, гьанал дару – рокьи. 246. Чохьол унти тIад чIвани, ботIрол унти тIагIуна. 247. Чохьол ургъел гьабуларесс ботIролги гьабулареб. 248. Чохьониб гьунареб кIалдибги гьунареб. 249. Чохьоцца гIадин, чи реххуларо. 250. Чоцца хIатIал росулел, тIад рекIарассухъ ралагьун (Чоцца юргъаги бачунеб, чи вихьун). 251. Чоцца чал кIанцIидал, оцоеги баркала кье. 252. Чоцца чи хIурулI речIчIулев, гIорцIмацца гъогъолI речIчIулев. 253. Чу берцин гьабула кьилиялълъ, чи берцин гьавула захIматалълъ. 254. Чу щведал, кьили щвечIо, кьили щведал, чу щвечIо. 255. Чу беэдун квегъе, чIчIужу еццун куцай (Чу беэде, чIчIужу ецце). 256. Чу босе гьод къокъаб, гьалмагъ ккве калам дагьав. 257. Чу босе, юргъа бихьун, налъи гьабе, чи вихьун. 258. Чу босулесс гьелълъул рилълъин цIеххедал, чол бетIергьанасс абурабила мавлидалде ахIун унев дибирассулалдасса ххеххаб бугилан. 259. Чу гьечIелълъуб хIамаги чуйилан толебила (тейила) 260. Чу, кIалдиб ххер ккун, холеб, къарум, дунялалда ххутIанщиналда ххадув ххачадулаго, холев. 261. Чу лъала, кьолокье ккедал, чи лъала, кьалде ккедал. 262. Чу лълъикIаб чияцца рекIинчIеб, лълъади лълъикIай чияе инчIей. 263. Чу лълъикIасс чодуе хIалхьи толареб, ретIел лълъикIав хьвадулев чIчIоларев. 264. Чу рилълъадассан лъала, чи рагIудассан лъала. 265. Чу хIалае ккун, хIамие кIалцIи щварабила. 266. Чу щолаго, гIорцIен гIабдаласс гурони рекIунареб. 267. Чу щолебги букIун, хIамихъ анищ гьабуге. 268. Чу-ярагъ лълъикIавилан, лълъиданиги цIцIар лъоге, лъалабалъги ратулел тадбир бугел гIадамал. 269. Чуги чIвачIого, чиги чIвачIого, хъала бахъулареб. 270. Чуги ццебе тун, лъалкI балагьулев. 271. Чуги цIцIалги гIола гIолохъанчияссе. 272. Чудкие балкан кинаб бугониги батIалъи букIунареб. 273. Чундузул убуразулI лIар биццатаб бис гIадав, лъарал лълъимазда гьоркьов хъахIилаб ралъад гIадав. 274. Чури бухIараб бахIри гIадин. 275. Чурпадул хIал гъодода лъала. 276. Чурул росода чIван, чIулгIи бекуге (Чи гурев чияссе кьун, лълъикIай яс хвезаюге). 277. ЧурулIа бахъараб гIункIкI гIадин. 278. Чурунилан щагIил чини лIугьинаро, чол русснада бухьунилан, хIамил чу лIугьинаро. 279. Чухъида квер бахъула, хъабчиде квер хьвагIула. 280. Чуял гIемер руго – тулпар цо буго, гIадамал гIемер руго – бахIарчи цо вуго.

  • n | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Ц c 1. Ца таралълъ мегIер толеб. 2. Цаби гьечIеб кIал - гьобо гьечIеб гьабирукъ. 3. Цаби лълъикIал Аллагьассго рижарал, гьава лълъикIаб живго гIураб ракьалълъул. 4. Цабзакье гIолареб гIоссокье щвана. 5. Цагъур лълъикIай – чехь лълъикIай, росс лълъикIай – жийго лълъикIай. 6. Цадахъ кваналезда гьикъун, тIаме цIцIам. 7. Царада гьикъарабила дуе дур лълъади кинай йигейилан. Гьелълъ жаваб кьурабила - лълъадул эбел жиндирго россассе кинай йикIарай ятаниги, гьединай йигилан. 8. Царада макьилъги гIанкIуялила рихьулел. 9. Царада ракIалда - гIанкIуял, гIанкIуязда ракIалда - муч. 10. Царае балагьалълъе ккараб жо жиндирго цIцIокойила. 11. Царакьа хIинкъун, лIутиялдасса, цигун вагъун, хвей лълъикI. 12. Царал бикьи къваригIунеб бакIги букIунебила, бацIил бикьи къваригIунеб бакIги букIунебила. 13. Царал кIал гъунани, гъадиццаги букъулебила ракьа. 14. Царал – рукIун, гъадил – бусен. 15. Царахъе щварабги – бацIие, бацIихъе щварабги – бацIие. 16. Царацца бацIида гьикъарабила гьадигIан цIакъ дур габур щиб гьабун биццалъарабилан. БацIицца жаваб кьурабила, жиндирго къваригIелалълъ жибго ун, биццалъанилан. 17. Царацца веццарухъанассул гъвесс кваналаребила. 18. Царацца тIанчIазда гьикъулебила - жинцца нуж лъабго къоялълъищила хьихьилел, лъабго моцIцIалълъищилан. ТIанчIаз жаваб кьолебила - лъабго къоялълъ хьихьеян. 19. Царгъида нахъаги тушман ватулев, чолода нахъаги хъумур батулеб. 20. Цер кибе аниги – рачIчI ххадуб. 21. Цилгун гени кваналареб. 22. Цида релълъарав вукIаниги, гьудул гьудул вуго. 23. Цидул кутакалдасса царал хIила бергьараб. 24. Цин бихьараб – беццаб, кIиабизе бихьараб – рекъаб. 25. Цилгун гени кванаге, гIабдалассулгун маххссара гьабуге. 26. Цин бицани – берцинаб, кIицIцIул бицани – мухьучIаб. 27. Цин вихьарав – гьобол, кIиабизе вихьарав – гьудул. 28. Цин вихьун, чи лъаларев. 29. Цин гъол кьурдухъе кьурде, цинги дуего бокьухъе кьурде. 30. Цин гьабизе кIкIухIаллъани, кIицIцIул гьабизе кколеб. 31. Цин гьабун, лълъикIлъи гIолареб. 32. Цин гьабураб лълъикIлъи гIоларессе тIокIаб гьабуге. 33. Цин гьекъарав кIицIцIул меххтула. 34. Цин гIакъилассда гьикъе, цинги мунго ургъе. 35. Цин – каралълъ чIван, цин – хIохьолI чIван. 36. Цин кьалбал риччай, цинги эххедеги а. 37. Цин кIал бухIарассила карщиде ххеххго пулеб. 38. Цин кIанцIана, гарцIцI, мун – борчIана, кIиабизеги кIанцIана – борчIана, лъабабизеги кибе борчIулебан бихьила! 39. Цин кIодолъулел, кIицIцIул гьитIинлъулел. 40. Цин мекъсса кколел, цин ритIун кколел, битIун ккараб гьабе, мекъсса ккараб те. 41. Цин ургъейила, ххадуб кьвагьейила. 42. Цин хIама хIобода бухьейила, ххадуб Аллагьассул цIцIобалда тейила. 43. Цин цIцIердассан хъущтIараб хIамагицин кIиабизе цIцIерде бахунаребила. 44. Цин чияде ккун, чи ххутIуларев. 45. Циналълъул гъоркьагьабихъила, циналълъул тIассагьабихъила (чияссул гIумру цо ккураб хIалалда букIунаребила). 46. Циналълъул гIор кваналеб, циналълъул лъар кваналеб. 47. Цингиялдасса гьанже лълъикI, эбелалдасса яс лълъикI. 48. Цин-цин битIараб рагIиги гьерессилъулеб, цо-цо меххалълъ битIун гьабураб хIалтIиги мекъсса кколеб. 49. Цин-цин гьорчоги чи вихьунила гирулеб. 50. Цин-цин гьудулги тушманлъулев, цин-цин тушманги гьудуллъулев. 51. Цин-цин гIабдалассги бицунеб гIакъилаб рагIи, цин-цин гIакъилги мекъсса ккезе бегьулев. 52. Цин-цин гIакъилги къосунев, цо-цо гIайиб гIалимчияссдаги кколеб. 53. Цин-цин кьили чол мугъалда букIунебила, цин-цин бетIергьанчияссул мугъалда букIунебила. 54. Цицца гъалбацI чIваларо, гъадицца цIцIум чIваларо. 55. Цо багьана бугелда рекъечIесс кIиго багьана бугей хьихьизе кколей. 56. Цо бакIалда чIчIараб лълъим ххеххго махIцуна. 57. Цо бахIарчилъи лIугьунилан, реццги гьабуге, цо къадараб жо ккунилан, къадараб цIцIарги чIваге. 58. Цо бер кьижун бугони, цоялълъ хъаравуллъи ккве. 59. Цо берцинай ясалълъ тІад квер бахъидал, ТIасса унти унеб заман букІана. Ругелщинал ясал къочананиги, Къоял аралдасса сахлъулев гьечІо. 60. Цо бетIералда лълъикI лъала, кIиго бетIералда дагьабги лълъикI лъала. 61. Цо бихьараб хьодуе те. 62. Цо бице, кIиго бице – гъваридаб бице. 63. Цо босизе кIоларесс - “КIиго кье дихъе”, – ян абурабила. 64. Цо боххида чи вилълъунарев, цояб гьакибер чIчIун, цояб гирулареб. 65. Цо бугеб рукIкIенги – рорлъи тIекъаб, цо вугев васги – гIамал мекъав. 66. Цо бугессул къосараб, къого бугессул битIараб гIи. 67. Цо ганчIил къед лIугьунаро, цо гъотIол ах лIугьунаро. 68. Цо гулиццаги цер холеб, цо рагIуццаги кечI холеб. 69. Цо гурони гIумру гьечIеб, кIицIцIул дунялалде риччаларел. 70. Цо гъая гьечIеб берцинлъи букIунаребила. 71. Цо гъая гьечIого, гъветI бакъваларо, цо гIузру гьечIого, ракI бечIаларо. 72. Цо гъотIол ах лIугьунареб, цо хIамил гвай букIунареб, цо чияссул бо гIолареб. 73. Цо гьабе – царал гьабе, хъергъуян гъеду ккоге. 74. Цо гьабулев чиги вукIунев, цо тIад рекъолев чиги вукIунев. 75. Цо гьабураб бечеги тIасса цаби гьечIеб буго. 76. Цо гьекъарасс кIигоги гьекъолеб. 77. Цо гьересси бицарасс нусгоги бицунеб. 78. Цо гьересси бицарассда кIиабизе божуларел. РосулIе ахIи бан лълъикI, гIадамазул букIунеб кеп бихьизеян ракIалде ккун буго вехьассда. - БацI! БацI! ГIиялълъ бацI речIчIун буго! Ххеххго рачIа! – ян ахIдон вуго гьев. ХIалуцун тIаде щварал гIадамал, вехьассдеги хьандолаго, нахъ руссун руго. ГIемер кватIичIого, вехьассул гIиялълъ речIчIун руго бацIал. КигIан цIакъ вехьасс гьарай бачаниги, цо гIадамасс гIин тIамун гьечIо. БацIазги лълъикIаб хъвехъари гьабун буго. Вехьассго гIадал ххвелал гьарулел рукIаралила, жив гIуруцца восун унев вугилан, цо гIолохъанчияссги. КIиабизе, унго-унголъун гIуруцца восун унеб меххалълъ, лълъиццаго бер тIамичIебила гьессухъги. 79. Цо гIила гьечIого, гIадан мискинлъуларо. 80. Цо гIила гьечIого, нухда моххмохх лъоларилан абурабила царацца. 81. Цо гIила гьечIого, цIцIад балареб, цо гIила гьечIого, бакъ щолареб. 82. Цо гIиялълъажо хъунги, бертин гьабейила, цIцIалкIу кIутIунги, берталълъ роххел загьир гьабейила. 83. Цо гIункIкI царгъикь гьабулебила, цо гIункIкI авлахъалда гьабулебила. 84. Цо жо бикъарасс кинабго бикъарабиланги кколеб, цо гьересси бихьарассул кинабго гьерессиянги кколеб. 85. Цо жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ гьедигIан кIудияб мухь кьеларин дуццаян абурабила бакьучалълъ бацIида. БацIицца бакьуч гуккулеб букIанила, жиндир анцIгониги кьарияб куйги бугила, мун квине ракIалдецин ккезеги ккечIила, бачIайила картIинисса къватIибе. Гьедин батани, жиб щибизейила къваригIун бугебилан чIчIанила бакьуч. Жинда давла батун бугин, гьеб жиндир добе бехъерхъизе кумек къваригIун бугилан абунила бацIицца. Жинцца дуе бащдаб давлаги кьелила. - Валагь, бачIинаро! – ян абунила бакьучалълъ. – Цо жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ гьедигIан кIудияб мухь кьеларо дуцца! 86. Цо каранда кIиго ракI букIунареб, цо кIазикь кIиго бетIер букIунареб. 87. Цо кваритIа кIиго палугьан кьурдуларев. 88. Цо квералълъ гарацIцI бухьунареб (цо квералълъ хъат чIвалареб). 89. Цо квешаб гIамал гьечIого, чи бечелъуларев. 90. Цо ккалараб мугьалълъ цогидабги хвезабулеб. 91. Цо ккве, цер ккве. 92. Цо куйдул рехъен лIугьунаро, цо гъотIол ах лIугьунаро. 93. Цо къадарав чиясс бодаго къадараб цIцIар чIвалеб. 94. Цо къвачIа кIиго гьабихъ балареб. 95. Цо къоялълъ дудаго хIехьезе кIолареб жо гIумруялълъго хIехьезе тIамугеян гьарун буго вокьуларессе кьолей ясалълъ инссуда. 96. Цо къоялълъ гIодор чIчIани, кIиго къоялълъ хIалтIизе кколел. 97. Цо къоялълъ нахъбахъун тараб жо – нусго къоялълъ нахъбахъун тараб жо. 98. Цо къоялълъ ццебе бекьараб анкьицца ццебе баккулеб. 99. Цо кьабун бекичIелда цоги кьабе. 100. Цо кIалзул хIухьелгицин кIиго батIияб - гьохьани бахьараб, пуни цIцIорораб. 101. Цо кIатIи гьечIого, тIамах гуруларо, цо гIила гьечIого, гьумер багIарлъуларо. 102. Цо кIовокIе, кIкIвахI реххизе кIолорищан, кIвечIони, хвараб дур хIалтIи. 103. Цо кIудиялдасса кIиго гьитIинаб бергьунеб. 104. Цо кIудиялдасса кIиго рекъараб лълъикIаб. 105. Цо лахIзаталда жанив бахIарчиги вахъунев, цо лахIзаталда жаниб чилъиги холеб. 106. Цо лъалиниб кIиго хханжар лъолареб. 107. Цо мокъида кIиго хIелкил бакъан рекъоларо, хIал рекъоларел росс-лълъадул ригьин ххалат ххутIуларо. 108. Цо натIицца тIупила, тIеренчедалълъ юкъила. 109. Цо нухалълъ ваччулев чи, хIатIал ххадур рехъерхъани, тIокIав ваччуларев. 110. Цо нухалълъ дур узденг ккурассул кIицIцIул дуццаги ккве. 111. Цо нухалълъ къун чIчIарав къого нухалълъ къун чIчIезе кколев. 112. Цо нухалълъ мекъи ккезегIан, лъабго нухалълъ гьикъун лълъикI. 113. Цо нухалълъ чинхъани, ссабру гьабе, кIиабизе чинхъани, ххеххлъи гьабе. 114. Цо пайда камураб квешлъи букIунареб. 115. Цо рагIи гIоларессе нусго рагIиги гIолареб. 116. Цо рагIудалъун тIубалеб калам кIиго рагIудалъун бицунге. 117. Цо рагIуе цо рагIи гIолеб, цо бакIалдассан цо ригьин гIолеб. 118. Цо рагIул чанго магIна букIинеги бегьулеб, чанго рагIул цо магIна букIинеги бегьулеб. 119. Цо рекIелI кIиго рокьи гьунареб. 120. Цо рекIелI кIигояссе бакI букIунареб. 121. Цо речIчIараб гIужда щвечIони, кIиабизеги речIчIе. 122. Цо речIчIаралълъ кIиго чIварав. 123. Цо речIчIе, гIужда щвеледухъ речIчIе, цо кьабе – ресалда ххадуб ккеледухъ кьабе. 124. Цо росулI цо гIабдал гIун вугилан абурабила ХIажихIума – дибирасс. 125. Цо рузманалълъе цо ххутIба гIолебила. 126. Цо сагIаталълъ ссабру гьабе, мунго бахIарчи вахъине. 127. Цо сон бараб меххалълъ гIорцIмада цо лълъикIаб гIамал кIочон толебила, кIиго квешаб гIамал лъалебила. 128. Цо сордо гурищилан, гъадил гIумру гъотIода арабила. 129. Цо сусур тIезеги гьелда рекъараб захIмат къваригIунеб. 130. Цо тоххаб рагIиялълъ нусго гIакъилаб рагIи хвезабулеб, цо гьерессиялълъ нусго битIараб хвезабулеб. 131. Цо тушманги – гIемеравила, нусго гьудулги – дагьавила. 132. Цо тIуни щиб болъонидасса рас, кIиго тIуни щиб. 133. Цо ххинкI бикьун кьезеги чIчIужу йикIун лълъикIила. 134. Цо ххунзахъев гьечIого, боги буцIцIунаребила, кIиго ххунзахъев гьоркьове ккани, боги биххулебила. 135. Цо хъамураб хъандие гIолареб, цин чияссде ккун, чи ххутIуларев. 136. Цо хъатIикь кIиго хъарпуз ккуни, кIиябго бортун унеб. 137. Цо хъатикь – цIцIам, цо хъатикь – цIцIал. 138. Цо хIай букIунареб, кIиго чи бергьунеб. 139. Цо хIал ккве, гьоркьохъеб ккве. 140. Цо чиги бо букIуна, богIанаб ракI бугони, боги рехъен букIуна, чахъабилъун ругони. 141. Цо чияссул боцIцIудалъун кIиго гьудул вахъунарев. 142. Цо-цо тушман камурав бахIарчи вукIунаро, Гьудул гьалмагъ тIагIарав цониги ватуларо. 143. Цо цIцIогь гьабурасс анцIабилебги гьабулеб. 144. Цо цIулал – раххан, цо маххул – газа. 145. Цо цIураб бугьнаццаги лал лIугIулеб, цо тIамураб галуццаги мегIер бегулеб. 146. Цо чахъдадасса кIиго тIехь бахъулареб, цо бахIарчи кIицIцIул холарев. 147. Цо чахъдае – квар, кIигоялълъе – тIил. 148. Цо чахъу кIанцIаралълъуссан киналго кIанцIулел, цо чиясс гьабураб жо киназго гьабулеб. 149. Цо чиясс гьабураб къадараб жо нусгоясда бихьулеб, азаргояссда рагIулеб. 150. Цо чиясс гьабураб хIалихьатаб жоялъ росуго ссурулеб. 151. Цо чиясс росу берцин гьабулеб, цолоцца къед берцин гьабулеб. 152. Цо чиясс ячарай кIиго чIчIужу – цо лъалиниб лъураб кIиго ххвалчен. 153. Цо чияссги бо буцIцIунеб, цо чияссги бо биххулеб. 154. Цо чияссда бицараб – ххалкъалдаго бицараб жо. 155. Цо чияссе кIиго чиги бойила. 156. Цо чияссул бахIарчилъиялълъ ЦIцIор бахъиларо. 157. Цо чияссул бо гIоларо, цо гьецIцIол си гIоларо. 158. Цо чияссул боцIцIудалъун кIиго гьудул вукIунарев. 159. Цо чIчIаралълъуб кIигоги чIчIун. 160. Цо чIваралълъ хъумур гIорцIцIуларебила. 161. Цоги – гIемер, азаргоги – дагь. 162. Цогиязул адаб гьабунгутIи – жиндирго адаб гьабунгутIи. 163. Цого вас – рукъалълъул ххан. 164. Цого вас эбел-инссуе Аллагь-аварагила. 165. Цого жо кIицIцIулги бицунге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге. 166. Цого инссул анцIабго лъимерги анцIго батIияб ххассияталълъул рукIунелила. 167. Цого иш гIемер буго, бечедассе цIцIар щолеб, Гьебго иш гIелму буго, мискинчи инжилъулеб. 168. Цогърониб гъваргъвар гурев, гъабуда делдел гурев. 169. Цогърониб гьури барай, гьороб бакъ барай. 170. ЦохIо бугеб бечеги тIехI бараб буго. 171. ЦохIо гIонкIкIоццаги хвезабулеб зобгIанассеб чIагIдал рагI, цохIо чияссги хвезабулеб ххалкъалълъулго рахIат. 172. ЦохIо килищ къотIани, тIолабго черххалда унтула. 173. ЦохIо мугьалъги цIцIалеб цIцIадиро цо рахъалде. 174. ЦохIо цIияб кици лъазеги годекIаниб къо реххейила. 175. Цо-цо бергьенлъи къеялдасса квешабги букIунеб. 175. Цо-цо гьересси оцол багьаябги букIунебила. 176. Цо-цо къоялълъ цо-цо рагIиниги лъачIони, хIамилгIанги гIундул ххалалъулел. 177. Цо-цо кIалзул ссадакъа кверзулалдассаги къиматаб букIунеб. 178. Цо-цо меххалълъ квешаб гьойги лълъикI хIапдолебила. 179. Цо-цо меххалълъ чияссул гьоко гъоркьа тIадеги гирула. 180. Цо-цоккун бищараб хьодол мугьалъги къали цIолебила. 181. Цо-цоккун тIинкIулеб лълъел къатIраялълъги гамачI борлIулеб. 182. Цо-цоккун тIинкIулеб лълъел къатIраялълъулги къечI хьвазе гIураб лълъим лIугьунебила. Цо гIолилав гIелму цIцIализе рикIкIаде ун вукIун вуго. Къоял ун руго, моцIцIал ун руго. ГIолилассда ракIалде ккун буго: унеб заманги бугила, цIцIалиялдассан жиндие гIураб лъайги щолеб гьечIилан. Реххун тун цIцIалигун, раччун тIахьазул цIурал ххулжалгун, рокъове вачIунев вукIун вуго. БухIун щун бакъги букIун буго, бакъван гIолилассул щекIер-мукъулукъги букIун буго. Нухдани ицц-лъар бугеб бакI батун гьечIо. Аххирги гьав щун вуго лълъел къатIраби тIинкIулеб цо кьурда ццеве. ГIодор ххулжалги лъун, гIолиласс тIинкIулеб лълъеда гъоркье дангъура ккун буго. Заман гIемер аниги, гьассие къеч хьвазе гIураб лълъим щун буго. - ВахI! – ан пикру гьабун буго гIолиласс. – ГьадигIан лъедерго тIинкIулел къатIрабазул къеч хьвазе гIураб лълъим лIугьунеб буго. Къол цо-цо рагIи лъазабуни, дие гIураб лъай щвезеги бегьулагури! ВукIарабго бакIалде нахъ вуссун вуго вас. ЛълъикIав гIалимчи вахъун гурони, рокъовеги вачIун гьечIо. 183. Цо-цониги гIайиб хханассул ясалдаги кколебила. 184. Цо-цониги гIакъилаб жо гIабдалассги бицунеб. 185. Цо-цониги гIакъилги мекъи кколевила. 186. Цо-цониги оцол багьаябги букІунебила гьересси. 187. ЦоцIцIул бицани – берцинаб, кIицIцIул бицани – мухьучIаб. 188. ЦоцIцIул кIодолъулевила чи, кIицIцIул гьитIинлъулевила. 189. ЦоцIцIул кIусизе кIкIухIаллъарав кIицIцIул кIусизе кколев. 190. ЦоцIцIул рижула, кIицIцIул хола. 191. Цояб бер беццассда кIиябго бер беццасс беццук-беццукилан абурабила. 192. Цояб бералълъе цояб бер бокьичIогойила гьоркьоб мегIер бижараб. 193. Цояб бихьичIого, цояб лъаларебила. 194. Цояб гьабулаго, цогиябги кIочон тоге. 195. Цояб квер лIулIачIого, цояб квер бацIцIунареб. 196. Цояб сон цояб соналълъул лагъ. 197. Цояб хъат данде къан, цояб гъоркье кквечIони, магIарухъ бетIер бахъулареб. 198. Цояб цоялда релълъараб мегIер букIунареб, цоял цоязда релълъарал лъимал рукIунарел. 199. Цояв виххичIого, цояв вуцIцIунарев. 200. Цояв гIабдал вугони, дандиявгIаги цIцIодорав вукIине ккола. 201. Цояв гIорцIцIун кIанцIолевила, цояв вакъун кIанцIолевила. 202. Цояз гIуцIцIулеб дуниял, цояз биххулеб. 203. Цоязе – ххунги ччунги, цогиязе – ччузецин щолареб дуниял. 204. Цоялда тIад кIиго лъе, кIигоялда тIад лъабго лъе (къадахъанассул кици). 205. Цоялда тIад кIиго лъуни, лъабго гIола. 206. Цояссе – авалалда, цояссе – аххиралда. 207. Цояссе – цIа, цояссе – кIкIуй. 208. Цояссул бер цIцIодораб, цояссул квер цIцIодораб. 209. Цояссул ххвалчен бакIаб, цояссул зар бакIаб. Цо рес къотIараб меххалълъ, бодуе хъвезежо кьеян гьарун, ХIажимурад живго ун вуго гІухьбузухъе. Жиндихъе вачIарав чи щивали лъачIев вехьасс гьессухъ гIин тIамун гьечIо. ХIажимурадги гьевги рагъизеги ккун руго. ЛълъикIго зарал вехьассдаги щун руго, дагьалги цIцIикIкIун ХIажимурадидаги щун руго. Валлагь, бахIарзал, заруе ХIажимурад ххвалчадуе гIадав ватичIилан гьалмагъзабазда бицараб меххалълъ, ХIажимурадил рекIарав КIудияв Таймасханицца ХIажимурадие гьаб кици тIамун буго.

  • ts | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Лълъ : Лълъадал берищ, рокьол гIусищ? Гьал рагIаби абуралила хIара чIварай ралила лълъадул угьи-зигараялде бер-ракI щвечIеб щайтIаналълъ. Кици тIамула бералълъулги гIусалълъулгигIан захIматаб унти гьечIебилан абураб магIнаялда. Лълъадал къатIраялълъги гамачI борлIулеб, цIадул хIенехIалълъги дунял бухIулеб. Лълъадаццаги жиндиего нух бахъула. Лълъади гьечIев россги росс гьечIей чIчIужуги – чIобогояб рукъ. Лълъади квешассул гIумру гIазабалда гирула. Лълъади лълъикIав лълъикI вуго, лълъади квешав квеш вуго. Кици гIунтIизабула Шамилил наиб Инквачилассде. Гьев цо росулIе щвараб меххалълъ, гIадамал гьессда гьикъарун руго: «Росу-жамагIат кин бугеб?» – ан. Гьесс жаваб кьун буго: «Лълъади квешав квеш вуго, лълъади лълъикIав лълъикI вуго», - ян. Лълъади чиярай лълъикIайлъун йихьулейила, чу нилIерабго цIакъаблъун бихьулебила. Лълъади ячине анцIгоявгун ургъе, йиччазе нусгоявгун ургъе. Лълъадигун вагъуларев лълъикьаниги къоларев. Лълъадул букIунебила букарулеб бакI, буххичIони букари къотIулареб. Лълъадул гIагарав чияссул яс васассе ячунге. Лълъадул ригьнивги вукIунге, лълъадул гIакаги хьихьуге. Лълъадулгун кколеб къеццалдасса тIагIам гьечIеб дандежо букIунареб. Лълъеда бараб полоп гIадаб жойила росс-лълъадиялда гьоркьоб кколеб кьал. Лълъеда бахъун накъищ чIчIолареб. Лълъеда тIад хъвадарун, ххатI лIугьунареб. Лълъеда хIал барасс бахъухъ цIцIикIкIун кваналеб, хIохь бахъарасс хIалтIи цIцIикIкIун гьабулеб. Дибирасс къулгьудалълъе цадахъ васги вачун вукIун вуго. Васассни лълъим гIемер гьекъей рекIее гIечIев дибир васассухъ квеш валагьулев вукIун вуго. Рокъоре щвараб меххалълъ, дицца мун къулгьудалълъе лълъим гьекъезе вачун вукIинчIин, бахъухъ квине вачун вукIанилан, дибирасс вас вуххун вуго. Дадайилан абун буго «гъадидасса цIцIодораб тIанчIицца», жинда рагIун букIанила, лълъим гьекъани, бахъухъ гIемер кваназе кIолилан. Дуцца дида гьеб некIого щайин бицун букIинчIебилан дибирасс вас кIиабизеги вацIун вуго. Лълъедасса лълъетIахъан хIинкъуларо, хIалтIудасса хIалтIухъан лIутуларо. Лълъеде мугъ чIваге, гьерссиде ракI гъоге. Лълъел къимат лъалебила къиндал, чияссул къимат лъалебила хведал. Лълъел цIолеб къулгIаялда асскIоб рукъ бугей эбелалълъул яс ячунге. Лълъел къимат лъалебила къиндал, чияссул къимат лъалебила хведал. Лълъел цIолеб къулгIаялда асскIоб рукъ бугей эбелалълъул яс ячунге. Лъелго вилълъинчIессда рекIадул къимат лъалареб. ЛълъетIа хIуччалги рахъуге, цIцIалкIуялълъ ралъадги буххуге. ЛълъетIасса тIорахь бахъулев. Лълъецца – гьобо, цIецца – кор. Лълъеца ордек биччулареб, бугьтаналълъ чи хъублъуларев. Лълъецца нух балагьулеб, гулица тушман валагьулев. Лълъида бихьарабги – «жиндаго бихьарав», лълъида рагIарабги – «жиндаго рагIарав». Лълъиданиги нилI инжит гьаризе кIоларелила, нилIеццаго гьаричIони, лълъиццаниги гIодорегIанги гьаруларелила, нилIеццаго гьаричIони. ЛълъикI букIаго, патихIа. ЛълъикI вугилан чIухIуге, квеш вукIараб меххги ракIалде щва. ЛълъикI вукIани, вокьулев, квеш вукIани, рихунев. ЛълъикI хьвадарав квеш холаро, квеш хьвадарав лълъикI холаро. ЛълъикI хьвадизеги дурго чорххол иххтияр – духъ, квеш хьвадизеги – духъ. ЛълъикIаб батани – канае, квешаб батани – цIулае. ЛълъикIаб бугъицца къуралде лIар хьвагIулареб, лълъикIав чиясс чияе чIухIи гьабулареб. ЛълъикIаб гара-чIвариялдаги киналълъулго бицунареб. ЛълъикIаб гьудуллъи ххазинаялдасса лълъикIабила. ЛълъикIаб – гьурщулеб, квешаб – баххчулеб. ЛълъикIаб дару кьогIаб букIунеб, лълъикIай чIчIужу хIеренай йикIуней. ЛълъикIаб жо беццизе кколареб; беццунилан квешаб жо лълъикIлъулареб. ЛълъикIаб жоялълъе къей гьечIеб, къадаралълъе бергьенлъи гьечIеб. ЛълъикIаб кечI чIалгIунареб, лълъикIаб ххабар рихунареб. ЛълъикIаб кициялълъул баракат насслабазего щолебила. ЛълъикIаб къайи босеян гьаризе кколаро, лълъикIай яс ячине чи камуларо. ЛълъикIаб къверкъ жибго бижараб хьуцIцIилI чIчIолеб. ЛълъикIаб кIалдибе босе, квешаб гIодобе реххе. ЛълъикIаб лъазе азарго къоги дагьила, квешалде ругъунлъизе цо къоги гIемерила. ЛълъикIаб малълъ босичIессда лълъикIаб къо бихьуларо, эбел-эмен разияв кинго басралъуларо. ЛълъикIаб нассихIат босулареб бетIер – рагьлил асар босулареб ссинухIатI. ЛълъикIаб рагIи – рукъалълъе ххайир, квешаб рагIи – гIадалI базе зар. ЛълъикIаб рагIуда мал бани, квешаб хIехьезе кколеб. ЛълъикIаб рагIул багьа – кьолораб чу. ЛълъикIаб ретIел ретIани, ссурукъайги берцинлъулейила. ЛълъикIаб ххассият берцинлъиялдасса лълъикIаб. ЛълъикIаб ххатIги – бащдаб гIелму. ЛълъикIаб хьоналда – лълъикIаб, квешаб хьоналда – квешаб. ЛълъикIаб хIайваналълъ нилI хьихьулел, квешаб хIайван нилIецца хьихьизе кколеб. ЛълъикIаб хIалалълъ гьарани, эххебе унеб лълъимги лъалхъулебила. ЛълъикIаб цIарагIалда цIадул бетIер букIунеб. ЛълъикIаб цIцIаргун хвейго лълъикI, ххалкъалълъе инжилъун, чIаго вукIинегIан. ЛълъикIаб чое даран гIемераб, лълъикIав чияссе гьудулзаби гIемерал. ЛълъикIаб чое хIалхьи толареб, лълъикIаб хIамие хIалтIи камулареб. ЛълъикIаб чое – цо цIцIал, лълъикIав чияссе – цо рагIи. ЛълъикIаб шитил – лълъикIаб бачIен. ЛълъикIабги бихьагийила, квешабги бихьагийила. КвешлъигIаги щай къваригIараб жоян гьикъараб меххалълъ, магIаруласс жаваб кьун буго: квешлъи бихьичIони, лълъикIлъиялълъул къиматги лъаларила, дагьабниги квешлъи бихьичIев чиясс къо ккараб бакIалда къвалги къаларилан. ЛълъикIабщинаб жубан гьабураб меххалълъ, квешаб жо лIугьунареб. ЛълъикIав Аллагьасс квешаб жо гьабулареб. ЛълъикIав багьадур вагъун хола, хIамабагьадур чIухIун хола. ЛълъикIав бахIарчи лълъикIаб рагIиялълъ тамахлъулев, къадарав бихьинчи лълъикIаб бицанагIан къвакIулев. ЛълъикIав бахIарчи ццеве тамахлъулев, нахъа къвакIулев; къадарав бахIарчи ццеве къвакIулев, нахъа тамахлъулев. ЛълъикIав бахIарчиги вукIунев, цIакъав бахIарчиги вукIунев. ЛълъикIав бахIарчияссдасса щивниги хIинкъуларев, къадарав чияссдасса киналго хIинкъулел. ЛълъикIав бахIарчияссул вас къадаравиланги тоге, къадарав чияссул вас бахIарчийиланги тоге. ЛълъикIав бихьинчи чIчIужугIадангун вагъуларев, лълъикIаб хIелеко гIанкIугун багъулареб. ЛълъикIав гьудул гьечIессда жиндирго гIайибал лъаларел. ЛълъикIав гьудулассда данделъараб къо – тIолабго дуниял дуе щвараб къо. ЛълъикIав инссул квешав васги, квешав инссул лълъикIав васги вукIине бегьулев. ЛълъикIав-квешав чи лъала, гьудулассухъ балагьун (Дур гьудул щивали бице, цинги дицца мун щивали бицина). ЛълъикIав мадугьал гьечIев чи – бищунго чиякъав чи. ЛълъикIав мадугьал кинав ватаниги ваццассдасса лълъикIав. ЛълъикIав хIакимасс гIадлу жиндассангойила байбихьулеб. ЛълъикIав чиясс квешлъи гьабурассеги лълъикIлъи гьабулеб, хIалихьатав чиясс лълъикIлъи гьабурассеги квешлъи гьабулеб. ЛълъикIав хIалтIухъанассул кIал чIчIун букIуна, кверал хIалтIулел рукIуна; квешав хIалтIухъанассул кIал хIалтIулеб букIуна, кверал чIчIун рукIуна. ЛълъикIав чигун квараб ххинкI квешав чигун квараб гьоцIцIоялдасса гьуинаб. ЛълъикIав чиясс жибги чIваларин, къадарасс чIвазе жибги чIчIеларилан абурабила гIодоб рещтIараб хIанчIчIицца. ЛълъикIав чияссда гIадамал цIакъаллъун рихьулел, квешав чияссда бищунго цIакъавлъун живго вихьулев. ЛълъикIав чияссе гьабураб лълъикIлъи – нухде бараб тIехх; квешав чияссе гьабураб лълъикIлъи – гьойдуе гьабураб хьит. ЛълъикIав чияссе гIумру дагьаб, гIабдалассе хвел дагьаб. ЛълъикIав чияссе лълъикIаб мацIцI рекъола, квешав чияссе квешаб мацIцI рекъола. ЛълъикIав чияссе лълъикIлъи гьабуни, лълъикIлъиялълъе батулеб, квешав чияссе лълъикIлъи гьабуни, бадиб багъизе батулеб. ЛълъикIав чияссе рецц-бакъ къваригIунаро. ЛълъикIав чияссе – цо рагIи, лълъикIаб чое – цо цIцIал. ЛълъикIав чияссул багьа – данд цIцIараб месед. ЛълъикIав чияссул букIунеб жо – гьари, квешав чияссул букIунеб жо – хьами. ЛълъикIав чияссул васассулI, кигIан квешав вугониги, цогIаги инссул гIаркьел камулареб. ЛълъикIавги квешавги ватIа гьавизе гьойдаги лъалев. ЛълъикIавги квешавги чи чодаги лъалевила. ЛълъикIавги рагIулевила, квешавги рагIулевила. ЛълъикIавги хола, цин-цин лълъикIлъиги хола. ЛълъикIай лълъадиялда бащадаб жо щибго гьечIеб. ЛълъикIай чIчIужу – анибго алжан, квешай чIчIужу – анибго жужахI. ЛълъикIай чIчIужу горбогьод гIадай йикIуней. ЛълъикIай чIчIужу, нуцIцIихъан къватIие йитIани, гордухъан нахъ юссун ячIунейила. ЛълъикIазулIа хъамурай, хъахIазулIа йищарай бищун квешай ятарай. ЛълъикIал ракьулIе уна, квешал кьочIчIокье уна. ЛълъикIалда мал бани, квешалда къвал базе кколеб. ЛълъикIассда ккараб налъи – нахъарукъ, квешассда ккараб налъи – магIирукъ. ЛълъикIассдассан – лълъикIлъи, квешассдассан – квешлъи. ЛълъикIассул лълъикIлъиги квешассул квешлъиги кидаго кIочонареб. ЛълъикIго кьолеб микьирги, тIадго арав гьоболги. ЛълъикIлъи бихьарассул – кар, квешлъи бихьарассул – малъ. ЛълъикIлъи гьабе дуе квешлъи гьабурассеги, тIасса лIугьа дудасса къолессдассаги. ЛълъикIлъи гьабе, квешлъияли жибго бачIина. ЛълъикIлъи гьабизе кIолареб батани, квешлъигIаги гьабуге. ЛълъикIлъи гьабулел Аллагьассда кIочон толарел. ЛълъикIлъи гьабурав аххир воххулев. ЛълъикIлъи гьабурассе баркала кьейги – мухьалда бащалъулеб. ЛълъикIлъи гьабурассе квешлъи гьабичIого, сордо рогьунаребила. ЛълъикIлъи гьабурассул квешлъиялдасса цIунаги. ЛълъикIлъи гьабурассул лълъикIлъиги квешлъи гьабурассул квешлъиги аххир-къадги жидеего ратулелила. ЛълъикIлъи гьоркьоб гьечIеб квешлъиги, квешлъи гьоркьоб гьечIеб лълъикIлъиги букIунаребила. ЛълъикIлъи гIадада холареб. ЛълъикIлъи кватIулебила, квешлъи ххеххго тIаде щолебила. ЛълъикIлъи-кумек гIагаразе гIадин гьабе, даран-базар чияразе гIадин гьабе. ЛълъикIлъи лъаларев чияссе лълъикIлъи гьабурав чи – хIамида меседил кIиликI барав чи. ЛълъикIлъи лълъикIав чияссда гурони лъалареб. ЛълъикIлъи малълъарав – тушман, тIад рекъарав – гьудул. ЛълъикIлъи хIехьезе аххтачодаги хханассул васассдаги гурони кIоларебила. ЛълъикIлъи хIехьечIесс, квешлъи хIехьолеб. ЛълъикIлъиги бихьаги, лълъикIлъиялълъул къимат лъазе; квешлъиги бихьаги, квешлъиялълъул кьогIлъи лъазе. ЛълъикIлъиги квешлъиги – кIиябго чияссдассан. ЛълъикIлъиялда ххадуб квешлъиги, квешлъиялда ххадуб лълъикIлъиги камулареб. ЛълъикIлъиялда ццебе – квешлъи, квешлъиялда ццебе – лълъикIлъи. ЛълъикIлъиялда данде лълъикIлъи гьабизе кIвечIони, кIочонтунгутIиги – мадар. ЛълъикIлъиялдасса квешлъи бергьунареб. ЛълъикIлъиялълъ квешлъи гьабулареб, квешлъиялълъ лълъикIлъи гьабулареб. ЛълъикIлъялълъе бицараб рагIи ссадакъа бугила. ЛълъикIлъиялълъе гIей гьечIебила. ЛълъикIлъиялълъул лълъикIлъиги холареб, квешлъиялълъул квешлъиги холареб. ЛълъикIлъиялълъулги квешлъиялълъулги тIанчIи гIемерал. Лълъим бахунелълъул гурони, чахъдада бацI кIочонареб. Лълъим бегараб гьобо гIадин. Лълъим бегараб гьобо гIадинги вукIунгейила, цIцIадае гъугъалеб зоб гIадинги вукIунгейила. Лълъим гьечIеб кIкIалахъ вукIун, лълъадад чи гIорцIцIуларев. Лълъим гьечIеб магIарда чу кIутIулареб, къачIеб магIардасса ххер бецулареб. Лълъим гIемерабгIан гIор – гIодобе биччараб, гIакълу цIцIикIкIаравгIан чи – гIамал берцинав. Лълъим гIемерлъунилан ралъад гьалаглъулареб, гIелмуялълъул цIунилан керен хIалуцунареб. Лълъим гIодобе тIолебилан, цадахъ лъимерги реххуге. Лълъим дагьлъани, гьобо чIчIола, кванил низам биххани, черхх загIиплъула. Лълъим дагьлъигун, гьабил гIузраби тIатуна, херлъараб меххалълъ чорххол гIузраби тIатуна. Лълъим рахънибе ккола, чи нухде ккола. Лълъим ссвакаларебила, сабаб тIагIунаребила. Лълъим тIад речIчIичIони, раква ссверулареб. Лъимадул бетIер унтани, эбелалълъул ракI унтулебила. - Лълъицца вакарав? - Дадацца. - Лъицца хьихьарав? - Дадацца. Лълъицца хъван бугебали балагьугейила, кин хъван бугебали балагьейила. Лълъицца щиб бицаниги, бацIицца ххер кунаро. Лълъицца щиб бицаниги, бищунго гIакълу бергьуна. Лълъудби гIемерав чи холаревани, Инсудада жеги херлъилароан. Руччабазул даран беццарабани, Дарбищил каранда маххел балаан.

  • t | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    О o Оборай елъулейила, хъахIба гIодулейила. Огь! – ан абизе ккараб къо бачIунгеги. Огь, бочIораб «ворчIами», чи вихьун, гаргадулеб; огь, бочIораб «ворчIами», чи вихьун, буцIцIун чIчIолеб. Огь, гъарим цого чахъу, чундузул болIе ккараб, Чабххил лълъим гьекъечIого, зумзумилан къеркьолеб. Огь, мун хваяв херав чи, гъассда рукIел ссурарав; Огь, мун хваяв херав чи, хIарччда кванай ссурарав; Огь, мун хваяв херав чи, босноб регел ссурарав! (Херал чагIаз, херлъиялълъул квешлъи бицун, абулел рагIаби). Огь, мун чIунтугеяб ГIандимегIер, тIагъургIанаб накIкI лъуниги, зобго цIураб цIцIад балеб. Огь, баркаман БергъубакI, пирпилаго цIа бакулеб, цIадабе реххун, пер бежулеб! Огь, эбелалълъул ракI, эбелалълъул ракI! Огьогьоялълъ гьорчIо кколаребила. Ордекалълъул тIанчIида хханинибго лъалебила лълъим. Охолисса бекьичIеб ххаслихъе бачIунареб (лъилъулареб). Охолисса гьабичIеб ххаслихъе батулареб. Охолисса карщ лълъама, ххаслихъе ххинкIал чIахIа. Оц бикъидал, къоно тIамурав, къотIнове лIугьиндал, хьитал рукъарав. Оц бикъун ххадуб тIамураб къанил пайда щиб? Оц бихьун, рихьи бай, басиялда гIурдул рай. Оц гьекъон бахъинегIанассеб заманалълъ лъалареб жо гьабизегIан, сордо-къоялълъ лъалеб жо гьабизе бигьаябила. Оц гьечIев хIаликъав, хIама гьечIев рилълъакъав. Оц гьечIессул рекьи хIалакъаб. Оц гьечIессул хур кIудияб, хIама гьечIессул гьир кIудияб. Оц гьечIессул хIалтIи бакIаб, хIама гьечIессул гьир бакIаб. Оц гьечIессухъе оцги биччаге, хIама гьечIессухъе хIамаги биччаге. Оц гIуниги – бече. Оц гIуниги – гIолохъан, гIала гIуниги – тагьи. Оц гIураб меххалълъ, гIинтIизеги ккогеги, гIолохъанчи гIураб меххалълъ, гIакълу малълъизеги ккогеги. Оц кьун, барщизарула, хIелеко кьун, рекъезаруларо (Шагьи кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре). Оц кьурул рагIалде къайгун, хIамида ургъел чIвалеб. Оц кIанцIизе кватIани, гIака кIанцIулеб. Оц лIугьунеб жо бачидаго лъалебила. Оц лIугьунеб жоялълъул лIар бегIераб букIуна. Оц мацIцI лъалесс бикъун батаги. ВуцIцIун чIчIарав чияссул цIцIогь тIатIинчIого ххутIизеги бегьула, гIемерни чвархъолев кIалачол балъголъи тIатинчIого, къватIибе реххичIого ххутIуларо. Гьединлъидал абула цIцIогьорассул хIакъалълъулI гьал рагIаби. Гьалълъулго абулеб куц ккола: «МацIцI лъаларев цIцIогьор хваги, цIцIар лъаларев тушман хваги», – ян абурабги. (ЦIцIар лъаларев тушман вуго балъгояв тушман). Оц тIураниги, Марямил гIайиб, релълъ беканиги Марямил гIайиб (Оц тIураниги – Марям, релълъ беканиги – Марям). Оц хвани – гьан, гьоко хвани – цIул. Оц хваниги, хур ххутIулеб, хур хваниги, ракь ххутIулеб. Оц хIалакълъичIони, хъизан гIорцIцIулареб. Оцаз гьабураб чоцца, рииялълъ гьабураб ххаселалълъ кваналебила. Оцал – магIарда, МахIама – рагIдукь. Оцал тIуричIони, тIегь балареб, тIаде ракь хъвачIони, хур бачIунареб. Кици буго некIссияб. НекIо умумуз, “оцбай” абураб ихдалил рекьул байрам тIобитIулаго, гьенир гьарулаан цIакъго тIассан ккарал гIадатал. Гьезда гьоркьоссан цояб букIана хьон хьазе, рекьуда байбихьизе рахъарал херал чагIазде, гьадал рагIабиги ахIулаго, тIаде ракь хъвалеб, росдал гIиссинлъиги ххадуб тIамун, оцал тIуризабулеб гIадат. Оцода бече гьабеянги абуге, гIака гьакидаги баге. Оцода гъоркь бече балагьулареб. Оцодаги букIунеб хIал, хIамидаги букIунеб жан. Оцол гIадаб габуралълъул, тIотIол гIадаб бетIералълъул. Оцол лIаран хIамил гIин ккоге. Оцол тIомол бицинчIого, тIомохьитазул бицунге. Оцол тIомониб бачил ракI лъурав. Оцол хъири бахъинчIони, магIил хъуй бахъунареб. Оцол, хIамил хIисабгьечI, хIамикIартил бетIергьан. Оцолаб босе, басидулаб те. Оцоцца гIанассеб хIалтIи гьабулев, хIамицца гIанассеб къайи баччулев. Оцоцца цIцIалеб букIаго, гьоко ссвакалареб. Оц хъвезеги бокьун гьечIо, гIака бичизеги рес гьечIо.

  • k | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Чч X ЧчугIа кколессул роц лълъелIила букIине кколеб. Ччузе бокьулев, ххузе бокьуларев вукIунарев.

  • kx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Ч x 1. Чабхъадул боцIцIи чабхъацца унеб. 2. ЧагIиги чIвачIого, чуги хвечIого, хъала бахъулареб. 3. Чадикълъи бихьаниги, чиякълъи бихьугеги. 4. Чадил къимат гьабичIессда къо квешаб бихьулеб. 5. Чадихъ гьан бичарав, дур чара хваяв, Чохьоцца реххарав, дур чилъи хваяв. 6. Чадицца цIунилилан цIцIодорлъи гIодоб тоге. 7. Чали гъазихъацца кколеб, гъарим пакъирасс кколев. 8. Чалуххай чIчIужу россассеги йокьулейила, росдаеги йокьулейила. 9. Чан батIияв, чан тIекъав, чан гIажизав, чан гIабдал. 10. Чан бахIарчи къосарав кухIлу бугел бераца, каранзул кIичIал ричIун, жаниве ваккизегIан. Чан меседу къосарай, къачIарал васал рихьун, къвал байдал, борохь батун, хьолбода жемизегIан. 11. Чан боцIцIи гьечIев гIалим гIодов ххутIарав, чан боцIцIи гIемерав гIабдал гIаршалде вахарав. 12. Чан гьабизе бигьаяб жо буго, чилъи гьабизе захIматаб буго. 13. Чан гьитIинаб бетIералълъ кIудияб бетIер къотIараб, чан гьитIинаб къукъа кIудиялдасса бергьараб! 14. Чан гIакъил вугев гIабдалассул малълъалда гъоркь! 15. Чан гIалимассул гIелму мискинлъиялълъ каранда жаниб ххутIараб! 16. Чан жагьилав гIабдал боцIцIуцца жаниве вачарав! 17. Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасса чи тIурулеб, чан зарараб жо бугеб, жиб тун чи вукIунареб. 18. Чанаре рачиналде гьаби кваназаруларел. 19. Чанахъанассул гьан биццатаб, гьабигьанассул чед биццатаб. 20. Чанахъанассул пишаялда баракат букIунареб. 21. Чангит барабщинаб чу букIунаро, чухъа ретIанщинав чи вукIунаро. 22. Чанго бихьичIого, рохьобе туманкI (ГIила гьечIого чияда гIайиб чIваге). 23. Чание мегIер лълъикIаб, чодуе авлахъ лълъикIаб. 24. Чанил бице чанахъанассе, чол бице чотIахъанассе. 25. Чаницца кьуру тун буго. 26. ЧанцIцIул борцаниги, хIамил рачIалда цого натIила. 27. Чара хвани, лочноцца гъадилгун чан гьабула. 28. Чаран къвакIула бацIанагIан, бахIарчиясс къо хIехьола хIал цIцIикIкIанагIан. 29. Чаран мугъалде ккун буго. 30. Чаранги биунеб, цIел хIал батани, гамущги меххтулеб, гIемер гьекъани. 31. Чаргъеду парххунилан, бакъул нур ссвинаро. 32. Чарухъаз гьабун, чакмабаз кваналеб заман бачIун буго. 33. Чахъаби ругони, вехь камиларо. 34. Чахъабиги цIунун, бацIалги гIорцIцIун. 35. Чахъдал къинлъиялдасса куйдул багьлъи бергьунеб. 36. Чахъдал тIом ретIараб чакъал гIемераб. 37. Чахъдал цIцIолъи бихьидал, цIцIе белъарабила. 38. Чахъдацца цIцIараб цIцIеде бачунге. 39. Чахъу гIорцIцIулареб, гIорцIен къинлъулареб. 40. Чахъу чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги багIарабила. 41. Чванта тIадагьлъани, гьудулзаби дагьлъулел. 42. Чвантида кIулал рарав. 43. Чвантиниб гIарац бугони, магIардаги ах гьабулеб. 44. Чвантиниб гIарац бугони, эбелалълъул къвалакьа яхъунги, яс кьолейила. 45. Чвантиниб гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIащтIи кодоб гьечIого, рохьове инго лълъикIаб. 46. Чвантиниб месед бугони, росулI яс камуларо. 47. Чваххулеб лълъадае нух камулареб. 48. Чваххун балеб цIцIад гIадав, щун бачIунеб гIор гIадав. 49. Черхх херлъаниги, ракI херлъулареб. 50. Черххалда гIакъуба бихьичIони, чехьалда рахIат бихьулареб. 51. Черххалда ракI чIчIоге, чи данде ккезе гурин! 52. Черххалда хIур бахинчIони, хIарччида нах бахунареб. 53. Черххалдасса гIорцIцIуге, къуваталдасса чIухIуге. 54. Черххалълъул цIцIайи цIцIадирабаз бицуна, чилъиялълъул цIцIайи мацIцIалълъ бицуна. 55. Чехь бакъарав, рукъ мискинав – умумузул къо-ассалдаса чIухIарав. 56. Чехь бакъунилан, рукъи балареб. 57. Чехь бухIуларессде рекIел ургъел бикьуге. 58. Чехь бухIун гIодани, беццаб бадиссаги магIу бачIунеб. 59. Чехь бухIун ракIалда ккураб жо киданиги кIочонареб. 60. Чехь гIорцIцIаниги, бер гIорцIцIуларев. 61. Чехь гIорцIцIарав – бер бакъарав, рукъ бечедав – ракI мискинав. 62. Чехь квешай кIалалълъе ккогеги, кIал квешай мадугьалихъе ккогеги. 63. Чехь квешасс рукъги бичулеб, ракI квешасс боги бичулеб. 64. Чехь сабаблъун бетIер ссуризе тогейила. 65. Чехь сабаблъун бетIер хварав бетIеркъотI. 66. Чехь цIезегIан кванаялълъ кIкIухIаллъи тIад гьабулеб. 67. Чехь чIвалеб жо – квен, черхх чIвалеб жо – рахIат. 68. Чехьалда рихараб жо нус гурони гьечIебила. 69. Чехьалълъ бетIер какарав бетIеркъотI. 70. Чехьалъеги черххалъеги бокьанщинаб гьабуни, чи бокьове ккола. 71. Чи вихьун, квен кьурал, чу бихьун, хер кьурал. 72. Чи вихьун, чухъа гьабе, гьудул вихьун, ракI рагье. 73. Чи вуххуге – малълъе, чу буххуге – кIалцIи бай. 74. Чи гурессда гьаруге, дурго хIурмат хунгутIизе. 75. Чи гьечIелълъув гIакъиллъун вукIиналдасса гIадамазда гъорлI гIабдаллъун вукIинго лълъикIила. 76. Чи гIемер – чи дагь, чу гIемер – чи дагь (Нагагь гурони, чу батуларо, надир гурони, чи ватуларо). 77. Чи гIемералълъуб гIакълу цIцIикIкIараб. 78. Чи гIемерлъани, гIадлу холеб. 79. Чи даражаялде, захIмат бихьун, вахунев, гIодове бигьаго кколев. 80. Чи къварид гьавурав воххун ххутIуларев. 81. Чи лъала рагIудассан, чу лъала рилълъадассан. 82. Чи лъазе бокьани, гьессие хIакимлъи кьейила. 83. Чи лъазе бокьани, гьессул гьалмагъассухъ ралагьейила (Чи лъазе бокьан, гьудул цIеххе). 84. Чи лъалилан абуге, лъороб гьецIцIо батизе гурин. 85. Чи чохьоццайила мискин гьавулев. 86. Чи хвезе бегьулев жинда чилъун вихьуларев чияссдассанги, чи хвезе бегьулев жинда жолъун бихьулареб унтиялдассанги. 87. Чи чIваларилан кьалги гьабуге, чу ссвакаларилан ахIудги рахъунге. 88. Чи чIван, балагьги бачIунгеги, чияда ццере къулизе ккарал къоялги рачIунгеги. 89. Чидай хIелиялдасса вакъи рекъон букIуна, яхI тун хьвадиялдасса къадру рекъон бихьула. 90. Чилъун лIугьине гIумруги дагьаб. 91. Чилъун лIугьинеялдасса гІалимчилъун вахъине бигьаябила. 92. Чини лъалин, ракI лълъида бихьулеб? 93. Чирахъ баканиги, чIчIужугIадан гьечIеб рукъалда нур букIунаребила. 94. Чирахъ гьечIеб рукъ – хIайван гьечIеб бокь. 95. Чирахъул канлъи гIоларессе бакъул канлъиги гIолареб. 96. Чияда базе бигьаяб жойила зигара. 97. Чияда бицараб жо – росдадаго лъараб жо. 98. Чияда божараб карщ лълъамияб букIуна. 99. Чияда велъуге, дудаго бадибчIвай бихьизе гурин. 100. Чияда гьардоге, дуццаго гьабе, гIедегIуге, лълъикI гьабе. 101. Чияда гьикъарав – гIакъил, гIакъилассда нахъвилълъарав – цIцIодор. 102. Чияда гьикъаралълъе дуцца жаваб кьоге - «ГьикъичIогобиц», – ан дудаго цIцIар лъолеб. 103. Чияда зигара базе инчIев жиндирго къварилъигун ххутIулев. 104. Чияда кверщел гьабизе лIугьарав лълъиего вокьуларевила. 105. Чияда ццебе хъат кквеялдасса хъирул къоно тIад байго лълъикIаб. 106. Чияда ццебе хъат ккурасс черхх бичула, чияе наку чIварасс намус бичула. 107. Чияда – цедер, дудаго – рокьо. 108. Чиядасса тIокIлъарассул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар бугев ххашазе тушманлъула. 109. Чияде абулелълъул, дурго эбелалълъулги пикру гьабе. 110. Чияде хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб. 111. Чияе бухъаралълъуре нилIго кколел. 112. Чияе гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек. 113. Чияе гьересси бицарасс дуеги бицунеб, чияе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб. Искандар Зулкъарнайидаги Дарвануш абулев хханассдаги гьоркьор ккаралила кIикъого къоялълъ гьоркьосса къотIичIел роркьарал рагъал. Дандеяссул къуват цIцIикIкIараб меххалълъ, Искандар хIилаялълъе ургъизе ккаравила. Искандарицца, цIцIикIкIараб къадар гIарац-месед кьезе къотIиги гьабун, Дарванушил кквезе щварав божарав гьалмагъ тIамуравила гьессда хвалил ругънал лъезе. Боги биххун гъоркь ххутIарав Дарвануш хханассда Искандарицца абурабила - «Рецц Аллагьассе, дир квердассан гурев, дурго бищун божарав гьалмагъассул квердассан мун холев вукIин!». Дарванушица абурабила - «Дун дуда тIасса лIугьана, лълъикIав бахIарчи, диени ххиянат гьабурасс дуеги ххиянат гьабизе бугебхха!». ГьебсагIаталълъго Искандарицца ххиянатчи гьессул хханассда ццевеги вачун чIваравила. 114. Чияе ккараб къварилъиялдасса воххарав ххалат воххун ххутIуларев. 115. Чияе нассихIат гьабун, дуццаго мунагь гьабуге. 116. Чияе рагIи бицунге, бицун ххадуб хвезе тоге. 117. Чияе хвел гьаричIого, дуего гIумру гьаре. 118. Чияеги гьабе, дуего гьабизеги кIочон тоге. 119. Чиякъасс ургъел катиде бикьулеб, вехьасс ургъел гьойде бикьулеб. 120. Чиякълъиялдасса чадикълъи лълъикIаб. 121. Чиякълъун чи ххутIугеги. 122. Чиякьа мунго къезе ххиянат гьабуге. 123. Чиякье кIалги ккоге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гьоркьоссанги раккуге. 124. Чияр бадибе унеб рас бихьулев, жиндирго бадибе унеб чIалу бихьуларев. 125. Чияр бакI бихьичIого, нилIералълъулго къимат лъалареб. 126. Чияр бакIалде араб лочнол нилIерго бакIалда бугеб гъадилгIан къимат букIунареб. 127. Чияр бахъухъалдасса нилIерго ххинкI лълъикIабила. 128. Чияр бихьизе – канав, жиндирго бихьизе – беццав. 129. Чияр бицин буго чияр гьан кванай. 130. Чияр бициналде дургоги пикру гьабе. 131. Чияр боцIцIиялда баххиллъизе бегьулареб. 132. Чияр боцIцIутIа бер биххуге. 133. Чияр васассдасса нилIерго яс лълъикI. 134. Чияр гьанадасса нилIерго гьуэр лълъикIаб. 135. Чияр гьорохъе кьурдуге. 136. Чияр гIадалI къараб чIор – гIеркъилI къараб чIор. 137. Чияр гIайиб ккола бачIараб балагь, нилIер гIайиб ккола бачараб балагь. 138. Чияр гIайибал рицунелълъул, мукъулукъ гIатIидав, жиндирго гIайибал рицунелълъул, гIундул раххчулев. 139. Чияр гIакълу босулареб бетIералдассаги цIунаги, бетIер гьечIей чIчIужуялдассаги цIунаги. 140. Чияр гIачIар какилалде, нилIерго басидулги багьа гьабе. 141. Чияр жо бикъарассул квер цIцIогьорабила, чияр жо ккурассул кверги кIалги цIцIогьорабила. 142. Чияр жо чияе те. 143. Чияр квен гьуинав, чвантил кIал къваридав. 144. Чияр квен гьуинлъугеги, чияр рукъ гьуинлъугеги. 145. Чияр кверацца мичIчI бетIизе бигьаяб жойила. 146. Чияр квеш бихьараб тезе кIваги. 147. Чияр кумекалде хьул лъоге, хIалтIун балагье. 148. Чияр куц-бегIалълъул бициналде цин матIуялълъуве валагье. 149. Чияр къварилъи жиндего бачIиндалила бичIчIулеб. 150. ЧIияр къимат гьабуларесс жиндиргоги гьабулареб. 151. Чияр кIиго шагьи ккурав чияссул багьа – кIиго кепек. 152. Чияр мажгиталълъуб как ахIулареб. 153. Чияр маслихIаталълъ росс-лълъади рекъон чIчIоларо, гъоркьагьобоги тIассагьобоги гIадин, цоцалI ххенон, жалго рекъон ккани гурони. 154. Чияр мегеж кквелалде, дургояб къунцIейила. 155. Чияр нахуде хьул лъун, нахударахъал гьаруге. 156. Чияр оц кваналевилан дирго ссан кваналев ватана. 157. Чияр рагIи – тIохде балеб цIцIад (РагIи – къватIиб, дун – рокъов). 158. Чияр ракьалда хханлъун вукIинегIан, нилIерго ракьалда узденлъун вукIинго лълъикI. 159. Чияр ракьалда чи беццав. 160. Чияр ракI релъиледухъ, накуги чIваге, чи чилъун вихьичIого, гьаваялдеги вахунге. 161. Чияр ригьиналда гьоркьове, гIабдал гурони, лIугьунаревила. 162. Чияр риди рахьилан ккогеги, рагьтIа гIака гьечIого ххутIугеги. 163. Чияр рокъоб квен тIагIамабила. 164. Чияр рокъов вугониги, чи лъала, чияда гъоркь бугониги, чу лъала. 165. Чияр рокъов дегIенлъунги вукIунге, дурго рокъов цIцIелъунги вукIунге. 166. Чияр ролIул чедалдасса нилIерго мочол гурга лълъикIаб. 167. Чияр ссадакъаялде саххаватго хьвадулев, жинццаго къватIибеххун къараб гурга кьоларев. 168. Чияр ссурукъ бихьараб дуццаго гьабуге. 169. Чияр тIагъур бахъани, нилIерабго къвалакь кквезе ккола. 170. Чияр хурибе рак баге. 171. Чияр цIакъалдасса нилIерго къадараб лълъикIаб. 172. Чияр цIцIоб батуларо, лълъадал нах бахъуларо. 173. Чияр цIцIоб – лълъадал щар. 174. Чияр цIцIобалде ккогеги. 175. Чияр чода рекIарав ххеххго рещтIуневила. 176. Чияр чода рекIарав хIарщукъотIнов рещтIунев. 177. Чияр чороклъи бихьизабулеб килищ бацIцIадаб букIине ккола. 178. Чияр чурпадулIе цIцIам жинццаго тIамизе те. 179. Чияр чIчIужу берцинайила, чияр чу цIакъабила. 180. Чияраб ссурун бихьун, нилIго кантIаги. 181. Чияралда бер биххарав, жиндирабго цагъриниб лъурав. 182. Чияралда хъваге, дурабго цIуне. 183. Чияразул бицунаго, дургоязулги пикру гьабе. 184. Чияргун гIахьалаб гIаладай, дунго бетIергьанаб хIамадай? 185. Чиясс дуе лълъикIлъи гьабуниги, квешлъи гьабуниги, гьелда нахъа цо гъваца батулебила. 186. Чиясс чи кIодо гьавуни, кIиялго кIодолъулел; чиясс чи инжит гьавуни, кIиялго инжилъулел. 187. Чияссда рекъаралила ишалги рукІунел. 188. Чияссдасса гьессул рагIад ххалатабила, гьессул гьунаралдасса рецц-бакъ борххатабила. 189. Чияссе гьабураб лълъикIлъиялдасса кIудияб ссадакъа гьечIебила. 190. Чияссе – гIамал берцинлъи, къохьое – нах, ратIлие – цIуни. 191. Чияссе – рагIи, хIамие – тIил. 192. Чияссе ссундулго гIей гьечIебила. 193. Чияссул бахIарчилъи борохь чIвазеги къваригIунеб. 194. Чияссул бахIарчилъи – ссабру гьабизе кIвей. 195. Чияссул чилъи жиндирго хъатикь букIунеб. 196. Чияссул гIамал хIакимлъун ккедалила лъалеб. 197. Чияссул ияхI – носол бал гIадаб жо. 198. Чияссул квешаб гIамал бахунеб унтиялдасса квешаб. 199. Чияссул къунтIаб гIамал-ххассият цо рагIудассанги бичIчIулеб. 200. Чияссул кьучIлъи – рагIи, рагIул кьучIлъи – тIубай. 201. Чияссул кIодолъи рарал соназулI гуребила букIунеб, гIакълуялълъулIила. 202. Чияссул хвел чияда бараб гьечIеб. 203. Чияссул хвелгицин берцинаб букIине ккола. 204. Чияссул тушманила жиндаго лъалареб жо. 205. Чияхъе тIагIел кьезе рокъотел виччай. 206. Чияцца гьабичIелълъул бициналде, дуццаго гьабуралълъулги багьа гьабе. 207. Чияцца гьабуралълъе къимат кьезе цIакъ бигьаяб жойила. 208. Чияцца гьабуралълъул гурони, жинццаго гьабуралълъул рогьо букIунарев. 209. Чияцца гьавун, чи лIугьунарев, жинццаго живго лIугьинавизе кколев. 210. Чияцца гьумер бухIизегIан, цIадуцца мегеж чIурхIаги. 211. Чияцца гIакълу малълъун, гIабдал цIцIодорлъуларо. 212. Чияцца кьураб бищунго лълъикIаб жо – гьáричIого кьураб жо. 213. Чияцца кьураб жа гьекъеялдасса живго бетIергьанаб лълъадал рагI гьекъей лълъикIаб. 214. Чияцца чи инжит гьавуларо, цин жинццаго живго инжит гьавичIони. 215. Чияццаниги кваналел Хъилидал багIаргIечал нилIеццаго кванан лълъикIила. 216. Чода рекъаралила тIукъбиги чIвалел. 217. Чода чIвалел магIазул гъанссида чIвалел магIал гьарурав Аллагь! Маххукъебедассул йикIун йиго цIакъ берцинай чIчIужу. Хханассе бокьун буго, гьелълъул россги тIагIинавун, жинццаго гьелдассан кеп босизе. Хханасс лъазабун буго къебедассда, метер радалалде нусго чодуе тIикъва-магI къотIичIони, жинцца мун чIвазе вугилан. Маххукъебедасс рокьукъаб ххабар чIчIужуялълъе бицун буго, кIвелародай рухI ххвассар гьабизеян хIалтIизе къассдги гьабун буго. ГIакъилай чIчIужуялълъ гьессда абун буго - дудассан тIалаб гьабулеб буго инсанассухъан гьабун бажарулареб жо. РачIа, къасси нилI регилин, метералде щиб бугониги ккелеб батила. Цониги магIги къотIичIого, росс-лълъади регун руго. Радакь, нуцIцIидаги тункун, хханассул нукарасс абун буго - «Ххан хун вуго, ххеххго гьессул гъанссида чIвазе магIал къотIизе тIаде вахъа», – ян. Маххукъебедасс гьурмада квер бахъун буго, ццереххун реххссарал рагIабиги абулаго, гъанссида чIвазе магIалги гьарун руго. 218. Чодасса гьоко ццебе унеб. 219. Чодасса рещтIун, хIамида рекIун. 220. Чодуе – цIцIал, хIамие – хIенссеркIо. 221. Чое – кьили, хIамие – гъалдибер. 222. Чое хъулухъ гьабичIони, лъелго рилълъине ккола, хIама лълъикI хьихьичIони, рохь мугъалълъ баччизе ккола. 223. Чол жал кколебилан, хIамил рачIчI ккоге. 224. Чол къимат лъаларев лъелго вилълъине кколев. 225. Чол хIал, гъогъолIе бачани, лъала, чияссул хIал, сапаралде цадахъ ккани, лъала. 226. Чордезе бокьарав лълъекьа хIинкъуларев, хIалтIи бокьулев бокьун вегуларев. 227. Чорххое рахIат гIемер гьабурав нахъа воххуларо. 228. Чорххол гьава цIцIикIкIарав цо хIалалда ххутIуларо. 229. Чорххол гIамал хисугеги, рекIел гIадлу биххугеги. 230. Чорххол гIамал хисугеги, хурул талихI бекугеги. 231. Чорххол сахлъи бараб буго роццада кванаялда, рукъалълъул ракIа-раххари – босаралълъуб босараб лъеялда. 232. Чорххол тIабигIат буго, керен тIуни, батIалъун чIчIолеб, тIечIони, кидаго хахулеб лъимер гIадаб жо. 233. ЧорххолI бугонани, нилIерго рухIги, махIалда бугони, нилIерго хIалги. 234. ЧорххолI бугони – рухI, чвантиниб бугони – гIарац. 235. ЧорххолI бугони – хIал, рокъоб бугони – махIал. 236. ЧорххолI витIарассе кинабго квен татуяб. 237. ЧорххолI витIи гIадаб чода чи рекIунарев. 238. ЧорххолI гьечIеб гьунаралълъ чи ццеве тIун инаро. 239. ЧотIахъанасс чу беццулеб, векьарухъанасс оц беццулеб. 240. Чохьое ияхI гьечIев, ракъуе ссабру гьечIев. 241. Чохьоеги рихьиеги бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколел. 242. Чохьол бухIиялда щибго релълъунареб. 243. Чохьол гурони, мацIцI лъаларев, чадил гурони, бицунарев. 244. Чохьол гьудулзаби чанги ратулел, къваригIиндал гьудул дагьав ватулев. 245. Чохьол дару – гьан, гьанал дару – рокьи. 246. Чохьол унти тIад чIвани, ботIрол унти тIагIуна. 247. Чохьол ургъел гьабуларесс ботIролги гьабулареб. 248. Чохьониб гьунареб кIалдибги гьунареб. 249. Чохьоцца гIадин, чи реххуларо. 250. Чоцца хIатIал росулел, тIад рекIарассухъ ралагьун (Чоцца юргъаги бачунеб, чи вихьун). 251. Чоцца чал кIанцIидал, оцоеги баркала кье. 252. Чоцца чи хIурулI речIчIулев, гIорцIмацца гъогъолI речIчIулев. 253. Чу берцин гьабула кьилиялълъ, чи берцин гьавула захIматалълъ. 254. Чу щведал, кьили щвечIо, кьили щведал, чу щвечIо. 255. Чу беэдун квегъе, чIчIужу еццун куцай (Чу беэде, чIчIужу ецце). 256. Чу босе гьод къокъаб, гьалмагъ ккве калам дагьав. 257. Чу босе, юргъа бихьун, налъи гьабе, чи вихьун. 258. Чу босулесс гьелълъул рилълъин цIеххедал, чол бетIергьанасс абурабила мавлидалде ахIун унев дибирассулалдасса ххеххаб бугилан. 259. Чу гьечIелълъуб хIамаги чуйилан толебила (тейила) 260. Чу, кIалдиб ххер ккун, холеб, къарум, дунялалда ххутIанщиналда ххадув ххачадулаго, холев. 261. Чу лъала, кьолокье ккедал, чи лъала, кьалде ккедал. 262. Чу лълъикIаб чияцца рекIинчIеб, лълъади лълъикIай чияе инчIей. 263. Чу лълъикIасс чодуе хIалхьи толареб, ретIел лълъикIав хьвадулев чIчIоларев. 264. Чу рилълъадассан лъала, чи рагIудассан лъала. 265. Чу хIалае ккун, хIамие кIалцIи щварабила. 266. Чу щолаго, гIорцIен гIабдаласс гурони рекIунареб. 267. Чу щолебги букIун, хIамихъ анищ гьабуге. 268. Чу-ярагъ лълъикIавилан, лълъиданиги цIцIар лъоге, лъалабалъги ратулел тадбир бугел гIадамал. 269. Чуги чIвачIого, чиги чIвачIого, хъала бахъулареб. 270. Чуги ццебе тун, лъалкI балагьулев. 271. Чуги цIцIалги гIола гIолохъанчияссе. 272. Чудкие балкан кинаб бугониги батIалъи букIунареб. 273. Чундузул убуразулI лIар биццатаб бис гIадав, лъарал лълъимазда гьоркьов хъахIилаб ралъад гIадав. 274. Чури бухIараб бахIри гIадин. 275. Чурпадул хIал гъодода лъала. 276. Чурул росода чIван, чIулгIи бекуге (Чи гурев чияссе кьун, лълъикIай яс хвезаюге). 277. ЧурулIа бахъараб гIункIкI гIадин. 278. Чурунилан щагIил чини лIугьинаро, чол русснада бухьунилан, хIамил чу лIугьинаро. 279. Чухъида квер бахъула, хъабчиде квер хьвагIула. 280. Чуял гIемер руго – тулпар цо буго, гIадамал гIемер руго – бахIарчи цо вуго.

  • r | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

bottom of page