﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Результаты поиска
1985 results found with an empty search
- tz | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Х [ 1. ХабалалIцин жиндие бакI гьечIев. 2. ХабалI жаназа лъелалде, цин гIурай яс россассе кье. 3. ХабалI лъуниги, ххиянат тIаде баккичIого чIчIоларебила. 4. ХабалI лъуниги, (ракьудасса) чияссул бер гIорцIцIуларебила. 5. Хахизе ракIалда – буртIида, лIутизе ракIалда – цIцIеда. 6. Хвалил зигара байги – чIагоязе кумекила. 7. Хвалил хIинкъи дандчIвани, гIонкIкIолги аздагьо лIугьунебила. 8. Хваниги йосила чияр яс, тIуниги бацIцIина квасул кун. 9. Хвараб бацIицца гIи гъурулареб. 10. Хвараб гъалбацIалдасса чIагояб гьойго лълъикIила. 11. Хвараб гIака – рахьдалаб. 12. Хвараб меххалълъ чиги кинавго лълъикIав, бахIараб меххалълъ букIараб чуги киназдассаго цIакъаб. 13. Хвараб ретIел нацIцIие, къадарав чи рагIуе. 14. Хварабниги чIорто дарайдул. 15. Хварав чи вагъаризавуни, бусен хъублъулеб, хвараб-араб жоялълъул бицани, ракIал хъублъулел. 16. Хварав чи каки – чIагоязе заралила. 17. Хварав чидай, хвечIев чидай? КIиго нухлулассда данде ккун руго хвел букъизе унел гIадамал. ГIолохъанасс херассда гьикъун буго - - Хварав чидай, хвечIев чидай молода вугев? - Мун гIадаллъунищ вугев, дир вас? РагIараб жо гуро хвечIев чи, молодаги лъун, вукъизе восун унев! ГIолохъанчи, херассул хIурмат цIунун, вуцIцIун чIчIун вуго. Къасси гьел щванила херассул росулIе. Ясалълъ инссуда гьикъанила - - Цадахъ вугев чи щив, эмен? - Нухда данделъарав дагьав гIакълу гьечIев гIолохъанчи вуго, дир яс. - ЩибгIаги гьесс гьабураб? Щиб ккараб, эмен? – ан цIехханила ясалълъ. - Гьабизеги щиб гьесс гьабилеб, дир яс. Дие гIантал суалал кьуна гьесс. Инссуцца ясалълъе бицанила хварав чияссул хIакъалълъулI гьесс гьикъараб жо. - ГIантаб жо гьикъун гьечIохха, эмен, гьесс дуда. Хварав чи вуго ххалкъалълъе инжитлъун хварав чи. ХвечIев чи вуго, живго хваниги, ххалкъалълъе жиндир ишалги цIцIарги нахъе тарав чи. 18. Хваразда ххадур чIагоял рилълъине бегьуларо. 19. Хваразе гурони, риччан таразе хоб бухъулареб. 20. Хваразул бицани, чIагоязул рахIат хола, араб-хваралълъул бицани, дандияссул рахIат хола. 21. Хварал рорчIизарулаго, чIагоязул тIом хIулулеб. 22. Хваралги релъила лъималазул рагIиялда. 23. Хваралги рикIкIани, гIухьби гIемерал, мутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал. 24. Хварассе зурма щайила. 25. Хварассул къулгьу гурел, гIурассул бертин гурел. 26. Хведал гурони, хьул къотIулареб. 27. Хвезе вокьарав чи кьолбоцца вецце. 28. Хвезе мехх щвараб меххалълъ хIама гъотIоде бахунебила. 29. Хвезе мехх щварав херасс я чIчIужу ячунейила, я чу босулебила. 30. Хвезеги гIажал кIудияб лълъикIила. 31. ХвезегIан чIаго тани, хвечIого рухI бахъугеги (НилI хвезегIан чилъи хогеги). 32. Хвел гьикъун бачIунаро, чIоралълъ чи цIеххоларо. 33. Хвелалдего хварав (чIагого хварав). 34. Хвеларев чIухIа, чIваларев вохха. 35. Холевлъи лъарабани, эмен цIцIамухъ вичилаанилан абурабила Мала Нассрудиницца. 36. Хвелилан давлад унарел, тIатинилан жо бикъулареб. 37. ХвечIого чияссул къимат лъаларебила. 38. Хераб гъветI турулеб, тараб хур чIунтулеб. 39. Хераб оцол пурццида ххадуб рахъ гъваридаб букIунебила. 40. Хераб хIамида рохьоб нух малълъизе кколареб. 41. Хераб бацIицца чахъу кIигоцадахъ хъамулебила. 42. ХерабгIан хIама сихIираб. 43. «Херав чи», – ян кIалъаге, мунги вукIине вугевин херав чи. 44. Херав чияссул ххиялал хабалIе цадахъ унел. 45. Херай йигониги, яс лълъикI, ххалатаб бугониги, шагьра лълъикI. 46. Херай чIчIужу ячарав гIолохъанчияссул буголъи, гьевги хун, хералълъе щварабила. 47. Херасс гIолохъанай лълъади ячани, кIиялго разилъичIеб даран кколебила. 48. Херассул – гIакълу, гIолохъанассул – къуват. 49. Херлъи бихьичIого, щивго хогеги, БихьичIезда лъазе щибжо гьебали. 50. Херлъи – гьойлъи. 51. Херлъигун гьойцца гьатIаналълъубцин хъублъи гьабулеб. 52. Херлъидал бацI гIонкIкIол цIцIобалде кколебила (Херлъидал цIцIумги къоркъол цIцIобалде кколебила). 53. Херлъиларев гьечIев, хвеларев гьечIев (Херлъиларев вохха, хвеларев чIухIа). 54. Херлъиялдасса баракат бугеб жо гьечIебила, тIаде бачIун гурони, тIасса унареб. 55. Херлъиялдасса квешаб жо – живго херлъун вукIин лъангутIи. 56. Херлъун ххадуб хъарчигъа тIанчIацца балъаргъунеб. 57. Херлъунилан бацI кваначIого чIчIолареб. 58. Херлъунилан бацIил цер лIугьинаро, цаби гъунилан ритIучIил багьа хвеларо. 59. Херлъунилан бацIицца бацIил гIамал толареб. 60. Херлъунилан оцолги гIалимчияссулги багьа холареб. 61. Хис-бас – шайтIаналълъул жо (дираб – дие, дураб – дуе). 62. Хоб тIупанагIан, ракI тIупулеб (ракь тIупанагIан, ракIалги тIупулел). 63. Холареб рагIиги букIунареб, рагIал гьечIеб авлахъги букIунареб. 64. Холареб ракI букIунареб, бахъунареб ццин букIунареб. 65. Холарев чи вукIунарев, холареб цIцIар букIунеб. 66. Холев чияссда ццебе нусго соналълъул гIумру чIчIолебила. 67. Хоно гьабизе – мадугьалихъе, кваназе – рокъобе. 68. Хоно – къурщил, къвакъвай – хъазил. 69. Хоно кьабун, гьецIцIо гъурулареб. 70. Хур асскIобегIан лълъикIила, гIагарлъи рикIкIадегIан лълъикIила. 71. Хур бекьичIесс хIанчIиларо, хер бецичIесс чIамиларо. 72. Хур босарав бечелъарав, рукъ босарав мискинлъарав. 73. Хур букIаго, ракъарал, рукъ букIаго, ругьарал. 74. Хур гуккуге, гьелълъ мунго дагьавги цIакъ гуккизе гурин (Дуцца хур цин гуккани, хуралълъ мун анцIцIул гуккулев). 75. Хур гьабулаго, рукъ хварай, рукъ гьабулаго, хур хварай. 76. Хур кIодолъиялдасса гьир кIодолъи лълъикIаб. 77. Хур лълъикIаб бугилан абе, тIорщел царгъинибе бараб меххалълъ, ххан лълъикIав вугилан абе, ункъабго къоно тIад чIвараб меххалълъ. 78. Хур-рукъ бичун аниги, инссул къо-асс бичун унареб. 79. Хур ЦIцIоробе балагьараб лълъикIаб. - Хур щай бичараб? - Пурццида кIутIизе гамачI батичIого. 80. Хурги дуццаго бекье, гьабихъеги мунго а. 81. Хурзал ракул цIуни, царгъал богIол цIола. 82. Хурзал чахIиял – чIамчIам дагьал. 83. Хуриб лълъикI жо бижизабизе Аллагьассде тIамун тоге. 84. Хуриб тIепаб, тIоххда ганжаб гьецIцIо тоге. 85. Хурибе ккараб хIамицца кIал кIудияб цIолеб. 86. Хурибе хьон – хьагинибе ххинкI. 87. Хурисса жо бачIинчIолъи чIарал гIайиб кколареб. 88. Хурищ бокьилеб, хурлъун дунищ? 89. Хурул мадугьал вакъарав ккаги, рукъалълъул мадугьал гIорцIцIарав ккаги. 90. Хурул хьон боцIцIийила, боцIцIул хьон рагIийила. 91. Хурул хьоналълъ чехь гIорцIцIаги, чохьол лъималаздасса ракI боххаги. 92. Хурулги рукъзабазулги бутIа бакьулIа босе. 93. Хурулги хьолболги цIцIину лълъикIаб. 94. Хурухъан кинав вугевали ххасалихълъиялълъ бицуна.
- m | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

М m M «Ма» бокьулев, «кье» рихарав. «Ма ссахI!» – ан бачIунеб гIака, «Кье ссахI!» – ан бачIунеб чу. «Ма» – ялда ццебе хIетIе лъоге. Мавул рокьи букIунеб, кьовул божи букIунеб. Магжида нус бабадулеб рекIинчIеб меххалълъ, кIалдиб мацIцI кIичIардулеб гьересси бицунеб меххалълъ. МагжилI иман букIунареб, рекIелI гурони. Магъал гьанахъ гьоэр щолареб (нилIее къваригIараб къоялълъ лълъикIалълъухъги квешаб щолареб). Магъил гIел тезеги Аллагьассул хIукмуйила. Магъил ургъел гьабулагойила хIанчIчIил боххдул тIеренлъарал. МагъилI ругел хурзабазги хабалI ругел умумузул рукьбузги гьабизе жо гьечIо – хIара хIажат буго. Магъихъ балагьун, кьурде, цер. Магь цIезе ссан гурел, ссахI цIезе хур гурел. Магъихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье. МагIарда бартуццаги лълъикIабаб кколебила. МагIарда гIи бугев – гIаг гьечIеб шарбал, ГIиялI куйдул ругев – тIох гьечIеб тIагъур. МагIарда чан букIаго, чурун хьаг цIеда лъоге. МагIардаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел. МагIарде ваханиги, гьитIинав кIодолъуларевила, гвандиниве рехханиги, кIудияв гьитIинлъуларевила. МагIарде гъуниги, хIамицца заз гурони кунареб. МагIарде гIазу баги, гIухьби рокъой рачIине, ГIурдаде саву ккаги, вокьулессда бер чIвазе. МагIарде гIазу бани, гIурухъе цIцIорой кколеб. МагIарзухъа кIалдибегIан къокъаб жойила гьересси. «МагIарзухъан бачIаги!» - ян, чед кьун, воххизавуге дун; гьумер битIун кIалъараб кIалалълъ воххизаве дун. МагIарул киниялълъ гIадин магIарул чияссул черхх лълъадаруларо. МагIарул мацIцIалда кечI ахIулел, гIурус мацIцIалълъ гаргадулел магIарулал. МагIарулазул хур хвани, хьиндалазул пихъги холеб. МагIарулассул нахъагIакълу. МагIарухъ дибирлъи щоларев – лъарагIалде, лъарагIалда дибирлъи щоларев – Нугъаялде. МагIарухъе вачIани, дурго гьобол лъаларев, Чачаналде вачIани, дурго хIама лъаларев. МагIирокъоб гIоди рекъараб, берталълъ аваданлъи рекъараб. МагIицца квен босарай, кочIоцца рос восарай. МагIицца магIирукъ берцин гьабулеб. МагIу кIиго батIияб букIунебила: цояб чваххун бачIунеб, цояб бачIинабураб. МагIу-рагIиялълъул ххалалъиго щиб, ххарицел гуреб жо мокърукьги гьечIин? Гьуя-гьараялълъул гьарзалъиго щиб, хъандиро гуреб жо магIида гьечIин? НекIо кицилъун тIиритIарал гьал рагIабаз бичIчIизабулеб буго мискинчияссухъ гIоди гIададиссеб бугилан. МагIихъаналда рагIун букIун гьечIо: «БоцIцIи хIажат гьечIо, хIара къваригIун буго», – абураб битIараб кици. МагIу рекъезе – рагIи, кечI рекъезе – далалай. МагIу рекъезе – рагIи , риба хIалаллъизе – хIила. Буссурман диналда риба гьабизе (къарзалълъе гIарац нусел лъун, яги ххайир гIахьал гьабизелъун кьезе) бегьуларо. Гьеб рикIкIунаан хIарамаб жолъун. Гьеб хIарамлъиялдасса жалго рорчIизе, рибачагIаз гьадинаб хIила гьабулаан: Дицца дудасса духъе кьуралдасса тIокIаб кепек тIалаб гьабуле гьечIо, «ракI разилъунни», дуцца дие «чIобого» кье нилIедаго гьоркьоб разилъи ккараб къадар. Данде ккве гIонкIкIол кици: «Диего гIоло абулеб жо батани, дир чехь бихъаги, гьирдани тIад къвачIа рекъараб жо буго». МагIу-рорчIи хханассул гIадаб, хвел букъи Гергил гIадаб. МагIу хвалилI ахIе, кечI берталI ахIе. МагIуги кечIги, рекIеда бухIараб меххалълъ гурони, бачIунаро. Мадинатги Гагуги гIадин. Мадинатги Гагуги рукIаралила цIакъ цоцазе рокьарал кьерилал. Цоцаздасса ратIалъун, Мадинат ккарабила нилIер рахъалде. Гагу ххутIарабила рикIкIадаб улкаялда. Гьеб къоялдасса нахъе нилIер Мадинатги бугебила «Гагу! Гагу!» – ян ахIдолеб ххутIун. Гьеб биценалда данде ккун хъварал руго ЦIадасса ХIамзатил ххадур реххссарал рагIаби: «Дун гурхIулароан, гохI-гохIалда чIчIун, Гагу! – ян ахIдолеб Мадинатида. БукIун буго гъарим, гьанже дун гIадин, Дандеябги билун, балагьалда гъун». Мадугьал квешлъани – рукъ хисе, чIчIужу квешлъани – цIцIар тIаме, чу квешлъани – биче. Мадугьал лълъикIав гьоркьоб къед борххатав; гьудул лълъикIав рукъ рикIкIадав. Мадугьал лълъикIассул ражихо-хоно россассе арабила, мадугьал квешассул лълъикIай яс рокъой ххутIарайила. Мадугьалассда велъуге: бадибчIвай бихьизе гурин. Мадугьалассул гьобол хунилан, Гьолокье магIиде арай. Мадугьалассул хIалтIи малълъунги, ясал чIчIун тогейила. Мадугьалассул хIелеко хъазлъун бихьулебила. Мадугьалассул чед гьуинаб, чияр чIчIужу берцинай. Мадугьалассулгун гьоркьоблъи бокьарасс рагьда гьой хьихьулареб. МадугьалассулI кин вукIараван гьикъулебила къиямассеб къоялълъ Аллагьасс жиндирго лагъассда. Чи хун, гьессул хIисаб-суал гьабулеб меххалълъ, тIоццебе Аллагьасс жиндир лагъассда гьикъулебила мадугьалассулъ кин вукIараван. Динияб рахъги ххал гьабичIого, гIаданлъи-намусалълъул рахъ босаниги, мадугьалассулъ лълъикI вукIин – гьеб буго бахIарчияссулI букIине кколеб бацIцIадаб ххассият. Мадугьалзабазги беццани, цIцIилцIцIиеги росс щолевила (цIцIилицIцIги россассе унебила). Мадугьалихъ йигей палихъаналда щибго лъалареб, лъаларей рикIкIадегIан йигелда «кинабго лъалеб». Мадугьалихъги ватугеги кIкIухIалав чи, хобги асскIобе ккогеги хIалихьатав чияссда. Мазандаран дарай диеги щвечIо, жулпакатаналда дунги рекъечIо. Мазгьаб гьечев чи – чед гьечIеб таргьа. Майданалда баххчун, цер чанахъанасс толаро. Мазлумассе зулмуялълъул къоялдасса залимассе гIадлуялълъул къо захIмалъулеб. Макру-хIила гIемерасс цо тIабигIат кколаро. Макьидасса бергьараб жо гьечIебила. Макьие гурони, вегизе ккогеги. Макьие ссабру гьечIеб, рокьуе берцинлъи гьечIеб. Макьу гьуинал беразда сардил ххалалъи лъалареб. Макьу тарав тушман ххадув ккогеги. Макьу толеб жо – ургъел, гIадан холеб жо – ххиял. Макьу щварал кьижула, рокьи ккарал ссвердула. Мали Къвегъадаго, къвал мажгитухъго. Къвегъада буго ххунздерил хабалазда асскIоб бугеб хварал росулеб мали лъолеб бакI. Кици хIалтIизабула молода лъоларевги къвалицца вухьунаревги чи вукIунарин, чIухIдаруге абураб магIнаялда. Маланассрудинида гьикъарабила жаназадул молол ццебейищин лълъикI букIунеб, нахъайищилан. Ццебе-нахъаялълъул батIалъи гьечIин, тIад лълъикIаб букIунарилан абурабила гьесс. Маланассрудинил далай лIугIаниги, чIандахабаралълъе лIугIи гьечIебила. Маланассрудинидаги илбисалдаги гьоркьоб къотIи ккун букIарабила, цо-цо кечI ахIун бахъинегIан, цоцазул гъежда рекIине. Цин илбисалълъул гъежда рекIарав Маланассрудиницца ахIарабила лIугIиго гьечIеб «далай-далай». «ЛIугIуларищ? ЛIугIуларищ?» – ан зигардулебги букIун, илбисалълъ гьарарабила, жиб дур гъеждаги рекIинарин, кечIги ахIиларин, талихI кьегийин, гъоркье лIугьаян. МалахIосен ахIарав ахIе, ХIункърае кьурассе кье. Малълъ кIутIаниги, ботIрода унтулеб. Малълъаниги лъалареб, бетIер гьодораб бугони; малълъичIониги босулеб, бетIер цIцIодораб бугони. Малълъараб босизе чи тIагIун ххутIугегийила. Малълъараб босуларевги – ахIмакъ, босуларессда малълъаравги – гIабдал. Малълъараб гьабе, гьикъараб бице. Малълъараб гьабичIев ХIавал ГIалицца хIуличIого бана гIака магIида. Малълъараб гьабуни, дагIба кколаро, гьикъараб бицани, кьал букIунаро. Малълъараб гьабуни, мекъсса кколаро. Малълъараб гьудуласс – гьабураб дицца. Малълъарабги гьабичIо, гьикъун бихье жиндаго, гьикъарабги бицинчIо, гьеле живго чи ццеве. Малълъарабги лъаларей, лъарабги гьабуларей. Малълъарассул кIал бекулареб, кIанцIарассул бохх гурони. Малълъарассул малълъарабги гьабунила жиндир эбел хварайилан абурабила Маланассрудиницца. Малълъаризе цIакъав, гьабизе къадарав. Малълъарун чи лIугьунарев, буххун хIамил чу лIугьунареб. Малълъарухъаби гIемерлъани, гIадлу холеб. Малълъизе киназдаго лъалеб, гьабизе цояссда гурони лъалареб. Малълъизе чи камуларо, малълъараб босизе бетIер букIине ккола. «Малълъизе чи тIагIаги дур лъималазе!» - ян абурабила цоялълъ. «Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босугеги дуразго!» – ян абурабила дандеялълъ. Малълъизе чи тIагIагиян гьарарабила цоялълъ; малълъараб босизе чи нужерги тIагIагиян хьамурабила дандеялълъ. Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босаги. МалълъичIеб гьабуге, гьикъичIеб бицунге. МалълъичIеб гьабурав, кьечIеб босарав. МалълъичIониги лъалеб, лъалесс гьабулелълъухъ ралагьани. МалълъичIониги лъалей, лъачIониги гьабулей. Малълъ босе гьитIинго, лъеберилI малълъизе ккарассдасса Аллагьасс цIунаги. Малълъа ццебеялдасса ххадуб. Малълъулел гIемерлъани, гIенеккулел дагьлъула. Малълъун гуребила лъалеб, бихьунила (Малълъун гурелила цIцIодорлъулел, бихьунила). Малълъун гуро чудкицца балкан кунеб, куцан гуро царацца къехь бищулеб. МалълъичIого цIцIаларав, цIцIаличIого дурусав. Малълъун чиги лIугьунарев, рахъдал мучариги лIугьунареб. Малълъухъе хьваде, хьихьухъе рукIа. Марагадал гурга габунибги бан, гаргаралълъул хъаба хъорщодаги лъун. Маргъалалълъул берцинлъи, кунада ххун, цIцIикIкIуна, къадруги дагьлъуларо, ххечIого тунин абун. Маргьабацца кантIула, магъалоялълъ кIвекIула. МаркIачIуде вачIунев кIичIудеги вачIунев, КIичIван тIагъур гIинда бан, богодеги вачIунев. МаслихIаталълъ рекъезарула, мацIцIицца ратIа гьарула. МатIу квешаб бугилан, гIайиб гьелде реххуге, МатIуялда гIайиб щиб, дур куц квешаб бугони. (МатIуялда гIайиб щиб, щайтIадул куц бугони). МатIуялда лъураб тIанкI ххеххго бихьулареб. МатIуялда лъураб цо тIанкIалълъ тIолабго матIу ссурукъ гьабула, цо кIкIухIалай гIаданалъ тIолабго гвай ссуризабула. Маххссара гажиялде ссверулеб, меххтел огьогьоялда лIугIулеб. Маххссара гьабе, бакI бихьун. Маххссара лъаларессе маххссара гьабулареб. Маххссара лълъикIаб, кIиго чи велъараб. Маххссараялълъе гIологи гьересси бищунгейила. Махх кьавуялълъ куна, гIадан ургъалицца куна. Маххул гел цIулал гелалде ккарабила, Маххул нуцIцIа цIулал нуцIцIаялде ккарабила. Маххщалицца нилIеда квен гьаруларо, жинццаго нилIее кьола. «Маххщел бугев» ХIасанил ГIали вукIаго, цоябги оц хъве! Маххщел гьечIев гьабигьан – агьлулъун гьечIев дибир. Маххщелги гьунарги – гьадингояб жо, гьудуллъи бугони, нухда ккола иш. Маххщелги гьунарги ххвалчацца къотIулареб. МахI квешалълъуб тIутI гIемераб. МахIаги гIагIаги гьечIони, мама букIунареб. МахIалда хIал букIаго, хIетI босе. МахIамалъун пер гурев, ГьатIиналъун цIцIан гурев. МахIцараб рекIелIан тIокIкIараб рагIи бачIунареб. МацIцI борхьилги лъан лълъикIаб. МацIцI гьой гуро, гьеб раххссида чIчIоларо. МацIцI гIадамассул кванаге, гIиял кванай. МацIцI кунаро, кваназе жо кье. МацIцI кIалдиб те, кIал богIое те. МацIцI лъаларев цIцIогьор хваги, цIцIар лъаларев тушман хваги. МацIцI лъалев – чода, чол бетIергьан – лъелго. МацIцI ххалатассул гIакълу къокъабила. МацIцIалда гьоцIцIо бугев, рекIелI загьру бугев. МацIцIалда нацIцI барав (МацIцI букарарав чи). МацIцIалда ракьа гьечIеб, гьелълъни ракьа бекулеб. МацIцIалда тIад – гьоцIцIо, мацIцIалда гъоркь – загьру. МацIцIалда хIал кIолаго, кIудиялде ваккуге, Каламалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге. МацIцIалда цIцIам бугев – цIцIанда борохь барав. МацIцIалда чаран лъурай мунги, чарххида цаби ккурай дунги. МацIцIалде гьоцIцIо тIун, гьодилI жо балев. МацIцIид чи чIвала, цIцIогьод оц хъола. МацIцIил цIцIад барав, цIцIогьол гIор щварав. МацIцIихъанасс чияр рукъ, цIа гъвечIого, бухIулеб. МацIцIихъанассул кIал цIцIороги, цIцIогьорассул бер бахъаги. МацIцIихъанассул кIалалдасса цIунаги, цIцIогьорассул квердасса цIунаги. МацIцIицца чи чIвалев, боцIцIуцца вичун восулев. МацIцIххалат, гIакълукъокъ. МачIчIадалда хIанчIида бадиб тIатIи бихьарабила. Маялда мал бани, кьеялда къвал базе кколеб. Маян бихьизе кодобеги кьолебила дуниял, кьурун бахъун, кодоссаги унебила дуниял. Маян кьечIони, дунги хваги, кьураб босичIони, мунги хваги. Маян кьолеб гурони, кьеян гьарулеб къо бачIунгеги. Маян кьураб босичIони, кьеян гьаризе кколеб. Маян кьураб жоялде божи цIцIикIкIараб. Маян кьураб кьагIрил гьан Квине лъачIев хIалихьат, ЦIцIай эххеде, беххебе Хераб гIакдал тIеренчехь. Мегеж танщинав гIакъил гуревила. Мегеж ххалатассул гIакълу къокъабила. Цо цIцIалунчияссда гьедин хъван батарабила тIехьалда. Валлагьин, дир хIакъалълъулIги гьединаб пикру ккезе бегьулилан, зарукьги ккун, ххутIараб мегеж чIурхIулев вукIанила гьев. Магжида парххараб цIаялълъ гьессул михъалги чIурхIун рехханила. Цинги доб тIехьалда батараб абиялда гъоркь гьесс хъванила: «Валлагь, битIарабги букIун буго!» Мегеж хъахIлъанагIан гIакълу ботIролIе. Мегеж хIурул цIун букIаниги кIваричIила, чехь гIорцIцIун бугони. Мегежали дагIнидаги букIунеб, михъалали катидаги рукIунел. Мегежги михъалги гIолелани, Бегунги бихьинчи йикIинаан. Мегежни кIудияб бугоан, гIакълу гьитIинаб гьечIебани. Мегьед кьурай – каранда, керен кьурай – мугъалда. МегIер бичилалде, ххер биче, ххер бичилалде, хьацIцI биче (къадараб ццебе биче, лълъикIаб ххадуб биче). МегIер мегIералде кколаребила, гIадан гIадамассде кколевила. МегIералда нахъаги мегIер батизе бегьулебила. МегIералълъул рикъзи метер бачIунеб. МегIералълъ кквечIеб авлахъалълъ кколареб. МегIер кIкIванищ? ГIор кIкIванищ? (Яшав гьабизеги гIадамазулгун хIал рекъезабизеги гьедигIанассеб захIмат баччизе кколилан абураб магIна). МегIер мегIералде щун бугилан абуни, божа; гIадамасс ругьунаб гIамал тун бугилан абуни, божуге. МегIер радал беге, гIор къаденахъе беге. МегIер цIураб гIиялIа гIангис гIоркIкIен бищарав, хъутан цIурал цIцIаналIа цIцIодегIен балагьарав. МегIергун барщун, гIанкIкI тIубаларо. Мекъаб нух ккурассе битIараб нух бецIцIаб. Мекъаб цIул гIадав, цIулалълъ ноцIцI гIадав. Мекъалда асскIоссанила ритIухълъи унеб. Мекълъи – гIакълуялълъул загIиплъи. Мекъиял нухал гIемер рукIуна, битIараб цо гурони букIунаро. Мекъсса гьабуниги, цин-цин битIун кколеб, битIун гьабурабги цин-цин мекъсса кколеб. Мекъи кколарев гIакъил ватичIев, нух къосунарев ццевехъан ватичIев. Мелъел – лъолъол, лъеретI – гъогъол, гъедел – цIулал, цIцIилкьал – ролIул. Мергил зуни зобалазде рагIарай. Мерго меседилай, тIагъди гIарцулай. Месед балагьизе арав, гьеб бухъулаго, хваравила. Месед букIин гIоларо, меседил квералги рукIине ккола. Месед кьавуялълъ кунареб, гIарац гIонкIкIоцца унареб. Месед лъала биани, чи лъала боцIцIуда гьоркьов, чу лъала рилълъадалъун; квешай чIчIужугIаданалълъул макруялда ххадув щивниги гъоларо. Месед хъванилан, хъирмил багьа холареб. Меседалда асскIоб лъуни, маххги кенчIолебила. Меседалдасса меседил кверал лълъикIал. Меседалълъ ракъи кколаро, гIарацалълъ къеч хьваларо, нахърател богIол гьабе. Меседги какула, кодой щвечIони, Какизе бегьилищ, дуе щвечIони. Меседил бацIцIалъи бииндал лъала, чияссул вацIцIалъи вихьидал лъала. Меседил кверазул багьа гьечIеб, гьел ричун росизе щоларел. Меседил къимат къотIаралъубила букIунеб. Меседил къимат устарассда лъала. Меседил кьили чIваниги, хIама хIама буго, чу чу буго. Меседил лълъикIлъи – кьаву чIвангутIи, чияссул лълъикIлъи – гьересси бицунгутIи. Меседил хIал цIадабила лъалеб, чияссул хIал хIалтIулIила лъалеб. Меседил ца бугев, царал рачIчI бугев. Меседил цаби ругессе гIемер хьимхьидизе бокьулеб. Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас. Мадугьалассул вас вачIун вуго, метер лалде оц биччаларищан гьикъизе витIанин инссуццайилан. - Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас, - ан абун буго мадугьаласс. Метер лал тIамилалде, лалил бетIергьан хун вуго. Кициялълъ бицунеб буго инсанассул гIумру лахIзаталълъги божи бугеб жо гурилан. Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, метер цIцIалилилан дарсалги тоге. Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, регIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге. Метер гьабулелде жакъа ургъе. Метер жужазе бугилан, жакъа рукъ лълъухьичIого тоге. Метер кколелълъул пикру гьабулессул бахIарчи вахъунаревила. Метер къоялълъул хIисаб гьабичIев нахъа пашманлъулев. Метер семиялдасса жакъа рагъи лълъикI. Метер щолел гьаналI пурщабаздасса жакъа щолел хъабхъилI пурщабиго лълъикI. Метералде тараб ссезеялде нахъбахъарабила, ссезеялде тараб гьоркьоб арабила. Метерго хвелел гIадин динги гьабейила, кидаго хвеларел гIадин дунялги гьабейила. Метерисселълъул пикру гьабуларессул жакъассебги букIунареб. Метерисса бохха, цер! (Билълъидалго бохха, цер!) ЦаратIинчI ун букIун буго къватIибе. Гьелда гIодоб батун буго цо нус. Гьеб берцин бихьараб царатIинчIалълъ нус кIкIун биччан тун буго. ЦIакъ боххун рокъобеги бачIун, жинда батараб носол хIакъалълъулI эбелалълъе бицун буго. - Кибхха гьеб бугеб? - Дицца гьеб къулчIчIана, эбел? - Метерисса бохха, цер! Метерисса царатIинчI, чохьол унтиги бахъун, хун буго. Мехх щварал къинлъила, къо щварал хвела. Меххтараб гIонкIкIоцца катида инссул цIцIар цIеххарабила. Меххтарав чияссе кьураб гIакълу – гIурулIе реххараб чIимихх. Меххтарассул дагIба-рагIи гIемераб, дандеяссул зарул пирххи гIедераб. Меххтарухъанассда яхI букIунареб, хIинкъарассда нич букIунареб. Меххтизабуни цIцIелжо бацIгун багъулебила. Меххтун велъила, вигьун гIодила. Микк чIаралълъуб микк бижула, чинари чIаралълъуб чинари бижула. Милат кIудияб букIунила, гьелълъул тарихх кIудияб бугони. Милаталда тIад вугев чияссул бетIер гьегьгIанаб букIине кколеб. Мимидулеб катихъе кидаго гIункIкI щолареб. Мина базе захIматаб, биххизе бигьаяб жойила. Мина босулелълъул, мадугьал цIеххе. Налъукьеги ккун, цоясс мина бичулеб букIун буго. Гьелълъул багьа чIчIезабун буго къого томен. Минаялълъул бетIергьан чIчIун вуго жинцца гьеб кIикъого томеналдасса гъоркье кьеларилан. Босулев чи чIун вуго къого томеналълъул багьаяб минаялълъухъги кIикъого томен абиялълъул магIна жинда бичIчIунарилан. Бичулесс гьессие жаваб кьун буго: къого томен рукъзабазухъги кколила, къого томен мадугьалассухъги кколилан. Босулев чIчIун вуго минаялда цадахъ мадугьалги вичулевлъи жинда рагIун букIинчIилан. Минаялълъул бетIергьанасс абун буго: рес букIарабани, азарго томен дуцца кьуниги, мадугьалассдассаги минаялдассаги жив ватIалъилароанилан. Ургъун вихьилилан, мина босулев нахъе ун вуго. Сапаралдасса вуссарав мадугьалассда бицун буго гьессул мадугьаласс рукъзал ричулел ругилан. АхIун рокъовегун, гьесс мадугьалассда гьикъун буго: кигIан налъийила дуда бугеб, щайила дуцца рукъзал ричулел ругел? Мадугьаласс, киссинисаги бахъун, гьессие къого томенги кьун буго, дагьабги хIажалъани, нахъеги вачIаянги абун буго. Цо заманалдассан дов чи вачIун вуго жиндир хIукму кканин, дуцца абураб багьаги кьун, рукъзал росизеян. Рукъзабазул бетIергьанасс гьессие мадугьалассулги жиндиргоги ккараб бицун буго. Дур мадугьалассул багьа къого томен букIун гьечIин, азарго букIун бугилан абунила гьесс рукъзабазул бетIергьанассда. Минуталълъ нахъа ххутIарав сагIаталълъ ххадув гъоларев. Мискинаб рукъалълъул мискинлъи баххчулеб жойила гIака. Мискинав вацассдасса бечедав ццинагIал вокьулевила. Мискинав вачIун, гьарун ина, залимав вачIун, бахъун ина (Мискинав вачIун, гьарун инебги лъаларо, залимав вачIун, бахъун инебги лъаларо). Мискинав ваццгIал – ццинагIал, бечедав ццинагIал - ваццгIал. Мискинав вукIа, бечедав вукIа, доре унелълъул – цого мусру. Мискинавилан росулI рагIизегIан, къарумавилан цIцIоралде рагIизе бокьилила. Мискинассде гьойги ххеххго бортулеб. МискинавгIан чи яхI-намус цIцIикIкIарав вукIуневила. Мискинассе заз гIадав, залимассе нах гIадав (ХIалимассе – хъиру, хъачΙассе – квасквас). Мискинассе къваригIиндалила гIор къунеб. Мискинассеги вакъарассеги бокьараб тIагъур данде кколебила. Мискинассул – гьари, бечедассул – хIал. Мискинлъаниги рагъулел росс-лълъади, бечелъаниги рагъулел. Мискинлъи баххчулев бечелъуларев, бечелъи ххирияв жо гIун холарев. Мискинлъи бугила балагь, гIагарлъи нахъе цIцIалеб, тушманлъи тIаде цIцIалеб. Мискинлъи лълъикIаб жо ани, бищун ццебе дибирасс жиндиего гьарилаан. Мискинлъи рогьо гуро, бечелъи гьунар гуро. Мискинлъиги ракъиги – яццгIалзабийила. МискинлъичIого гьудул лъаларевила. Мискинлъиялда велъулев, вежа-велъун вахъинчIев. Мискинлъиялдасса бакIаб гьир гьечIеб. Мискинлъиялълъе дару – хIалтIийила, хIинкъиялълъе дару – таваккалила. Мискинчи бечелъани, кIиго чIчIужу ячуней, Бечедав мискинлъани, цIцIогьодизе лIугьунев. Мискинчи вукъизе кьураб нусго гъурущалдасса чIаго вукIаго гьессие кьураб гъурущ бергьунебила. Мискинчи - живго мискинав, къарумассул – ракI мискинаб. Мискинлъи – росдал балагь, ссадакъа – ракъул балагь. Мискинчи тIадеялълъул бечедав. Мискинчи ххасало лъалев. Мискинчи ххиялаз бечелъулевила. Мискинчиясс бечелъи хIехьолареб, бечедав чиясс мискинлъи хIехьолареб. Мискинчиясс ссахIие гIоло мегIер бегулеб. Мискинчияссда велъуге, бечедассде хьул лъоге. Мискинчияссе дару – хвей. Мискинчияссул букIун буго, гьелълъул мугъалда хур бекьун, хъизан хьихьараб цо гьирил чу. Цин-цин, дагьабниги тIаде гьан бахинеян, гьесс гьеб гъолеб букIун буго магIарде. Чолни гьод цIцIоролалдего, гъарим мискинчи ине кколев вукIун вуго гьеб нахъе бачине. БетIергьанчи вихьараб меххалълъ, чу хIихIидулеб букIун буго. Ассги жаваб кьолеб букIун буго: «ХIи-хIи-хIи! - щиб букIинеб, дир гъарим, я мун хваги, я дун хваги! Гурони нилIее рахIат гьечIо!» Мискинчияссе квекIен гIемераб, бечедав чияссе кумек гIемераб. Мискинчияссе цIцIамуда ччураб ххинкIги гьуинаб, бечедав чияссе гьоцIцIоги цIцIекIаб, цIцIибилги кьогIаб. Мискинчияссул багьа – къого куй, нуцалчияссул багьа – нусго куй. Тариххаз гIемерал мисалаздалъун нилIеда бицуна ракьул бетIергьабаз кигIан цIакъ жидерго къимат гьабулеб букIараб, мискинчи кигIан къимат гьечIевлъун, гIодовегIанавлъун гьез рикIкIунев вукIаравали. Ракьул бетIергьабаз жидер балъазда, ххассал балъазда, рихьизарулел рукIун руго лагъассул, узденассул, нуцалчияссул батIи-батIиял къиматал. Гьел къиматал хIисабалде росулел рукIун руго чIвай-хъвей, лIукъа-къотIи ккараб меххалълъ рахъулел рецIелазеги. Мискинчияссул бечелъи – сахлъи. Мискинчияссул гьудул дагьав, рохь гьечIеб магIарда чан дагьаб. Мискинчияссул нуцIцIида нахъа жул букIунебила, рокъобе бачIараб бечелъи лълъухьун реххизе. Мискинчияссул рокъоб къецц гIемераб. Мискинчияссул рукъ – росу рагIалда, апарагассул хоб – хабалазул рагIалда. Мискинчияссул тушман гьечIев, лълъиегони вокьуларев. Мискинчияссул хур хханассул мегIералда бащадаб. Мискинчияссул хIорго ххутIарал гъудал. Мискинчиясс жиндирго хуриб бекьун букIун буго цIцIороссоролI. Гьава-бакъ рекъараб сон букIиналълъги, чIаран, хъуссун лълъикIго хъулухъ гьабидалги цIцIороссоролI цIакъ хIалигъун бижун бачIунеб букIанила. Мискинчиясс пикру гьабунила: исана дие хурисса лълъикIаб бачIин щвезехъин буго. ТIаде-гъоркье чагIиги рачIина, киназегони гIурал гъудал дир къавулI гьечIо. Валлагь, бачIин бакIарилалде, дун рохьове гъудал гьаризе ун лълъикI! Жиб-жиб къоялълъ хъулухъ гьабулеб букIараб хурги жибго тун, мискинчи, гIащтIиги бикIароги босун, рохьове къокъанила. КъотIанила цо лъорил гъветIги, гьарунила гIезегIанго гъудалги. Мискинчи тIад вуссиналде, рохьил болъоназ пасат гьабун батанила хур. Бахъун чIараб цо хIуби цIцIороссоролIулги тун гьечIоанила, бухъ-бухъун бан хурги хвезабун бугоанила… Гьеле гьедин хIорго ххутIун руго мискинчияссул гъудал. Мискинчияссул яс берцинай лIугьаги, вас лебалав лIугьаги. Михъида квер бахъулеб меххалълъ гьабичIеб жо магжида квер бахъулеб меххалълъ гьабун бажарулареб. МичIчI бекьаралълъуб – мичIчI, жух бекьаралълъуб – жух. МичIчIида мичIчI бижулеб, жухида жух бижулеб. МичIчIил кьолбода кьагIрил ххер бижуларо, кьурул нохъода гIарац-месед бижуларо. Могоро бан гуревила дибир реххулев. Дибирассда лъазабун буго метер бачазул иргаялде айилан. Дибирассул чIчIужу гIелгун къаццандизе лIугьун йиго, дибир бачазул иргаялде витIулеб гIадат гьечIилан. - Мун юцIцIун чIчIа! Могоро бан, дибир реххуларев, бачазул иргаялде аян лъазабураб гIола, - ян абун буго дибирасс. Могьое – гьали, гьанае – кватIи. Могьол хIурмат гьабурав вакъун ххутIуларев. Мокъ гьечIеб гIанкIу гIадин ххутIун вугила. Мокъ ккун босизе кини гурел, квер ккун бачине лъимер гурел. Мокъиде хъазги бахинабун, хIелкида къинлъеян абуге. Мокъокъ буго къвакъвалеб къасси бертин бугилан, микки буго гъулгъулеб цадахъ жибги бачеян. Мокъокъида чIор речIчIани, чIоролида зунтIулеб. Мокърукь бетIер тункичIого, гIакълу щолареб. Моххмоххалълъул нахалда чIоролодул нах бахунареб. Моххмоххги кIудияб, квасги ризаб куй букIунареб. Моххмоххиде хьулги лъун, хьолбодассаги ватIалъун. Моххмоххил маргьа бице, дада, моххмохх кварал гIадин рукIине. Моххрода хоно бухьунге, оцода данде баси баге. МоцIцI бугони, цIцIваби щай? МоцIцI канлъулеб рещалъидал, яс берцинлъулей балугълъидал. МоцIцI нилIехъан бугони, цIцIвабзазул хIал кколаро. МоцIцIиде гьабураб щвартIалдеги биххулеб. МоцIцIроде хIапдолеб гьой гIадин. МоцIцIрол гьумералдаги тIанкIал рукIунел. Мочол мугь гIанассел нилI рокьани, оцол бергIанниги нилIееги рокьулелила. Мугъ бекаяссул эбел, вас гьавулей йикIарай, оц гIорцIцIизе чIарги хун, чIвараб накуги унтун! Кицилъун лIугьарал ххалкъалълъул рагIаби руго хIалихьатав васассде абурал. Абун ратизеги бегьула гьессие гIоло наку чIварай эбелалълъ. Кициялълъ бицунеб буго некIого нилIеда кIочон тараб цоги жоялълъулги. РацIцIалъи букIиналълъул мурадалда, хIара чIварай чIчIужугIаданалда гъоркье реххулеб букIун буго бакъвараб чIарал квацIи. ЧIарахъан абураб рагIиги гьелдассан бачIараб букIине ккола. Мугъ биччичIони, хур биччулареб. Мугъ ссверунги чехь бугев. Мугъ ххалатаб чу гуро, чехь кIудияб оц гуро. Мугъ чIвазе бакI бугони, зарул пирххи букIуна. Мугъ чIвазе бегьулев гьудулассде щвараб жо щибго гьечIеб. Мугъалда квер бахъулев, чахьалда малал ралев. Мугъалълъ баччиялдасса чехьалълъ баччи лълъикIаб. Мугъзада чед букIаго, чехь бакъизе биччаге. Мугь бищун, бечелъуларевила, борч тIубан, мискинлъуларевила. Мугь гIемер гьализабе, гьан кватIизегIан гьагIдалI те (Могьое-гьали, гьанае – кватIи). Мугь-мугь ккун реххунила гIанххрил мигьирги гIолеб. Мугь цIубайдал, тIор къулулеб, пихъ бакIлъидал, гъветI къулулеб. Мугьалде мугь реххунила къали гIолеб. МугьгIаналълъул тIагъур гьабуге, тIутIгIаналълъул пил гьабуге. МугIрул гIариялдассаги цIунаги, гIи гьечIеб хъвехъариялдассаги цIунаги. МугIрул гIундул цIцIодорал, гIалххул берал цIцIодорал. МугIрул каву гIатIидаб, гIалххул берал цIцIодорал. МугIрул ракьандаги гIурул рагIалдаги чи вакъичIевила. МугIрул рохьаз берцин гьарула, рукъ лъималаз берцин гьабула. МугIрул рукъ – буртина, рукъалълъул хIуби – чIчIужу. МугIрул рукъги рукъалълъул хIубиги гьаруларебила. Цо гIандиссев буртабалълъе ун вукIанила. Цо лъалев-хъвалев буртисесс гьассда жиндирго гьобол цIехханила. Дагьал къояздассан жив ГIандиве вачIине вугин ва гьоболассда буртина гьаризе бугиланги бицанила. ГIандиссев рокъове щванила. Буртиссессул гьоболассда гьев буртиссев вачIинехъин вукIинги гьесс буртина гьаризехъин букIинги бицанила. Гьарани кьелеб батилаххаян гIандиссессги абунила. Цо анкьидассан буртиссев вачIанила ГIандиве. Цо кIудияб къваригIелго гьечIого вачIиналълъул, гьоболассда гьаризе цо жо букIиналълъул бицанила. ГIандиссесс, буртиссессул бицунеб жоги гьоркьоб къотIизабун, абунила: - ЛълъикI буго, гьобол, бокьараб жо гьаре, кьела. Цинги мугIрулги рукъги рукъалълъул хIубиги гьаризе бегьуларебхха. Хъассулаго гъванщагун, буртинаялде букIараб хьулги хIорлъун, буртиссев нахъ вуссун ун вуго. МугIрул хьон битIаги, хьиндал пихъ битIаги. Макъан – Гъуниб, кьурдулел – Ххунзахъ. МукIурлъиги – бахIарчилъи. Мун бечелъизегIан бечедги чIчIечIин, Бичилищ, эбелхвад, нухда гъоркьа хур? Мун, букIинчIеб рокъоб рекъечIеб кето, нухтIа битIун билълъа, батIергьанчихвад. Мун вахине гохI балагьулев дун – дун реххизе кIкIал балагьулев мун. Мун вихьила, дун йихьилаялълъул лълъикIаб жо кколаро. Мун вичIчIуларезде ургъел бикьулареб. Мун вокьулев чийилан рекIелI бугеб бицунге, дуцаго цIуничIеб жо чияцца цIунулареб. Мун вокьулессде рокьоялълъ гIагарлъе, вокьуларессдасса къол нухалълъ рикIкIалъе. Мун гъалбацI ватани, гIадамалги гIанкIкIал гурел. Мун гIадиналин гIадамалги рукIунел, дуе гIадинин гъозиеги бокьулеб. Мун, заманалда рекъон, хьваде, заман дуда рекъон хьвадулареб. – Мун кибе, гьитIинаб? – КIудияб балагьизе. Мун кида биххилебилан гьикъарабила къадада. ХIарщуда гьикъейилан жаваб кьурабила къадацца. «Мун кида хвелеб?» – ан гьикъарабила къохьода. «Нахуда гьикъе», - ян жаваб кьурабила къохьоцца. Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIунин, дурни устарги киданиги бахъинчIилан абурабила бацIицца гъотIоркIоялда. Рехъалълъа кьегIерги хъамун, тIурун унеб букIанила бацI. Цо гъотIокье щвейгун, гьелда чIинхъи чIванила. ГъотIода чи вугиланги ккун, гIодобе кьегIерги реххун, тIуранила бацI. Дагьаб добегIан щвейгун, лъалхъизеги лъалхъун, нахъбалагьанила. ГъотIода чи вукIун гьечIила, роххти борлIулеб гъотIоркIо букIун бугила. «Дуда чIчIегIераб къо чIчIад! – ан абунила бацIицца гьелда. – Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIуна, дурни устарги киданиги бахъинчIо!». ГъотIоркIоялълъ данде гьадин къотIанила: «ЧIчIегIераб къоги, бацI, дудаго чIчIаги! ГIумру чахъаби рикъулаго аниги, дурги гIияхъан лIугьинчIо». Гьалда щай жиб кIалъарабан ракIалдеги ккун, бацIицца ххазабунила. – Мун кисса? – Жеги чIчIужу ячинчΙо. Мун къватIиссайилан дир къеццен гьечIо, РосулI къотIуларо къебедасс месед. Мун кьижун вукIунев, дур тушман кьижуларев. Мун кIодо гьавурав дуццаги кIодо гьаве, даим кIодолъи жиндиего къваригIарассда асскIовеги къаге. Мун кIочон тезегIан гIемерги кьогейила, Аллагь, дие боцIцIи, гIадамал гурхIизегIан дагьабги кьогейила. Мун лъелго вилълъине ккелароан, чода кIалдиб таргьа балебани. Мун лълъикIабилан абуни, хIамикIертги боххулеб. Мун лълъил гьакида рекIаниги, кечI гьессул бакъаналда ахIе. Мун мегIер ватаниги, цогидал мугIруздеги мугъчIвай гьабе. Мун хвела, дур лълъикIлъи кидаго хвеларо. Мун хIинкъизе кколаро – ккезе биччаге мунагь; гьеб чуризе кколаро – гьабуге ххияналъи. Мун цер ватани, дунги царал рачIчI ккола. Мун цIакъабилан абуни, хIамикIучIги кьурдулебила. Мун цIцIализе унелълъул, дун цIцIалун вачIунев вукIана. Мун чи ватани, чухъа ретIараб гIоларо, чорххолI гIадамассул тIабгIги букIине ккола. Мун чи ватилилан восун вукIана, ТIад пихъ бижулареб чинаридул гъветI. Чи мун вугилан ккун, восун вукIана, Чурун бацIцIунареб цIцIел квасул турут. Мунагь бугейила, буйзе ккани, кIудияб буйила. Мунагь камурав чи вукIунарев, гIайиб камураб квен букIунареб. Мунагьазул унтиялълъе дару – тавбу гьаби, чорххол унтиялълъе дару – кванил низам чIчIезаби. Мунагьго гьечIей яс ялагьулаго, чIчIужуго щвечIого, ххутIаравила. Мунги – ххан, дунги – ххан, хIама лълъицца гьекъелеб, хуриве щив инев? Мунилан холев дун, дун хабалалълъе восагиян мун. Мунго дудаго лъачIого, чияде рагIи абуге. Мунго дуццаго! Вехь вукIаравила хъощнив ххинкIал гьарулев. БачIарабила гьессда асскIобе цо щайтаналълъул тIинчI. Гьеб гогьаб тIанчIицца гьессул лъел цIураб парччи бегизабурабила, хьагинибе лахI бортизабурабила. Вехьасс кигIан лълъикIаб бицаниги, гьелълъ вехь цо хIалалда течIевила. Ццин бахъарав вехьасс щайтIаналълъул тIинчI, бан малгун, къватIибе реххарабила. ЧIичIидулаго гьеб лIутун унеб меххалълъ, ахIарабила вехьасс: «Дицца гуро мун, мунго дуццаго!» – ян ЧIичIидулаго жидер тIинчI бачIунеб бихьараб меххалълъ, щайтIабазул ахIи бахъарабила. «Лълъица мун? Щиб дуе?» – ян вехьассул хъош бугеб рахъалде рекерулел рукIаралила. ЩайтIаналълъул тIинчIалълъ жаваб гьабурабила: «Дунго диццаго, дунго диццаго!» - ян. Мунго дуццаго бугеб меххалълъ, щай ниж ахIуд рахъинаруралан, щайтIаби, тIинчIги буххулаго, нахъ руссаралила. Мунго дуццагоги веццуге, гьечIеб гьунаралдассаги чIухIуге. Мунго гьалаг гьавулеб гьаваялда рекIунге. Мунго тIассайилан мунги ватила, тIассатIохда рукIун, дудаго релъулел гIадамалги лъаларого. Мунищ наиб, дунищ наиб? Гьадин абула, гIагарав чияссул хIакимлъиялде мугъги чIван, жидерго хIакимлъи билълъинабизе бокьулел, кколарел ишал бетIералде росулел гIадамазул хIакъалълъулI. Аби бачIун буго Шамилил наиб Инквачилассдассан. Гьессул эбел лIугьуней йикIун йиго гIарзалълъ рачIаразул ишалда гъоркьое. Наибасс эбелалда абулел рукIун руго гьал рагIаби. Мурадалде щун, щивниги хвечIевила. Муса аварагасс Аллагьассда гьарарабила жинде гIадамал гаргадизе риччагейилан. Аллагьасс абурабила жиндего гаргадизе гьукъуларел гьел дуде гаргадизе кинин гьукъилелилан. Муса хурив вугониги, хурив Муса вугониги – цого жо. МутагIилзабазул цIцIалиялдасса цIцIогьол гьанал цIураб къвачIа бокьила. МутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал, гIухьбиги рикIкIани, гIантал гIемерал (хварал гIемерал). МутагIиллъун вас вугесс яс гьечIилан абуге. МутагIиллъун вугев васассдассаги россассе кьурай ясалдаги гьимун ца бихьуге. МухIума хвеялдасса ГIума хвейго лълъикIила. Мучариги чед гуро, чухъаги ретIел гуро. Мухь босиларилан аби – устарассулги гьересси, россассе инарилан чIчIей – ясалълъулги гьересси. Мухь гуреб жо кьун, вехь гурев чи тоге. Мухь щолареб хIалтIухъ баркалаги – мухь. Мухьни кьеларин, баркалагIаги щай кьолареб? МухIканлъи – шартI (МухIканлъи шартIилан, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх барабила). «МухIканлъи шартI» абураб кици тола, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх баялда бухьинабун, релъа-роххун. Гьебни буго мухIканлъиялълъул хIакъалълъулI бугеб гIакъилаб кици. Хханасс пикру гьабулеб букIанила, жиндир вазирзабазда гьоркьосса кинавдай пуланаб вилаяталде хIакимлъун витIилаян. Гьесс хъулухъчагIазда буюранила, жиндир тIотIола гъадринибе тIун лълъимги лъе, къотIараб рахъги гъоркьеххун гьабун, гьенибе бащдаб гIечги реххеян. Цинги ахIанила цо вазир. Гьикъанила гьессда гьаб гъадриниб бугеб жо щибилан. Вазирасс жаваб кьунила гIеч бугилан. Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила цоги вазир. Гьессиеги кьунила гьагъабго суал. Гьессги жаваб кьунила лълъелIе реххараб гIеч бугохха, хханилан. Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила лъабабилевги. Гьессиеги такрар гьабунила гьагъабго суал. - МухIканлъи – шартIан абун гьечIищхха, кIудияв ххан, – анги абун, лъабабилев вазирасс цо гьитIинаб гIучI балагьанила. Цинги, бегунисса реххун, битIунисса реххун гъадриниб бугеб жогун, хханассе кьучIаб жаваб кьунила: «Гьаб бугохха, ххан, лълъелIе реххараб бащдаб гIеч». Хханасс гьев вазир витIанила доб вилаяталде хIакимлъун.
- g | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Сс S Ссабру алжаналълъул кIулила. Ссабру гьабулеб бугилан чи валъаргъунге, си гIураб меххалълъ, биххулебин. Ссабру гьаби гIоларо, рекIелI гIакълу гьечIони. Ссабру гьабурассе пайда кIудияб. Ссабру гьечIев чияссул гьабун жо релълъунаро. Ссабру – гIакълуялълъул ххан. КIудияв чиясс васассул васассда малълъулеб букIун буго, ворехха, дир вас, мун ххеххдаруге, гIакълуялълъул ххан ссабруйин кколеб. ЧIчIужу ячун мехх бахъилалдего, гьев ккун вуго рагъде. Рокъове щвечIого, ун руго гIемерал санал. Гьасс пикру гьабулеб букIун буго чIчIужу жиндие ххияналъанадай, россассе анадайилан... Аххирги гьав щун вуго сардилI жиндирго минаялде. Цин рокъове лIугьиналде, тIохдеги вахун, ццебетIалаялдассан рокъове валагьараб меххалълъ, бихьун буго таххида вегун цо бихьинчи вукIинги, гьессул бетIералда кверги лъун, жиндирго чIчIужу йикIинги. КIудияв инссул малълъ босичIев ххеххдарухъанасс, жанивеги лIугьун, цин хханжар кьабун буго бихьинчияссда, ракIалда букIун буго чIчIужуги чIвазе. «Вай! ЧIвана гури дуцца дурго унтарав вас!» – ан чIчIужу тIад ххурххараб меххалълъ, бичIчIун буго гьессда ссабру гIакълуялълъул ххан букIин. Ссабру тIагIарассухъа тIад гьабун жо босуге. Ссабру ццебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе. Ссабруялда чIчIарассе пайда камулареб, ххеххдарухъанассул ххиялал хIорго ххутIулел. Ссабруялълъ мегIер лълъухъалеб. Ссабруялълъул тIиналда – багIараб месед. Ссабуралълъул аххада - роххел. Ссабруялълъул тIиналда тIогьол майдан рагIула. Ссабурассе – бохх, виххарассе – ратIа. Ссадакъа кье кваранаб квералълъ, кьураблъи квегIаб квералда лъаларедухъ. (Квараналълъ кьураб квегIалда лъазе кколареб). Ссадакъа кье рукъ бакъулареб, хIалтIи гьабе черхх чIвалареб. Ссадакъаги къадеквенги – дагьаб жо. Ссадакъаялълъ хьихьулессул къадруги букIинаро, бараб гIетIалълъ тIувалессул къиматги хвеларо. СсахIие жо рокъоб гьечIей, къолоде жо тIад ретIуней. СсахIил пайда гьабулаго, къолол зарал ккарабила. СсахIилги роцен лъазе ккола. СсахIихъ ссахI гурони щолареб. СсахIицца къеларо, къолоцца бергьинаро (Жо гуреб жоялълъул бицунге). СсахIицца хIама цIцIараб, рахъицца оц цIцIараб (хIал щун, унтараб). Ссвакарассда нух гурхIулареб, вакъарассда чед гурхIулареб. СсваквачIого чIчIани, чIчIечIого вилълъине кколев. Ссванилан ккараб цIа рекIинеги бегьулеб, ссванилан тараб питна цIилъизеги бегьулеб. Ссвараб ххвалчен, чарххида ккуни, рекIуна; гIантав чияссулги, гIадамалълъе вахъани, мадар лIугьуна. Ссверун къачIеб азбар – цаби гьечIеб кIал. СсалихIицца жергъен гIадин, рекъезабе. Ссан – дуе, хур – дие, бекьизе – дуе, кваназе – дие. СсанкIиний лъуниги, чIчIужугIадан цIунун бажаруларей. СсогIаб чу бичула, квегъуд буссунареб бугъа хъола. Малълъараб гьабуларей чIчIужуялда щиб гьабилеб? СсугъралIа чиясс гьабураб жо анкьго соналдассан гурони тIатунаребила. Ссугъур къан букъе, къехь биччан букъе. Ссундуе букIаниги, пал лълъикIаб къотIе. Ссундуего жиндир заман, ххасало-гIазу, риидал-цIцIад. СсундулIго роцен букIине кколеб. Ссундулго аххир букIунеб, анищалълъул бицен ххутIулеб. Ссургу гIадинги вукIунгейила, жини гIадинги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила (Ссургу гIадин хъалалъанги вукIунгейила, жини гIадин гъорлIанги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила). Ссуриялдасса хвелго лълъикIила. Ссурун хвей – кIицIцIул хвей.
- kx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ЦI ` 1. ЦIа бакаралълъуве кIкIвелун, кIкIуй баккаралълъуве гьелун. 2. ЦIа босизе арай гьолокьей россассе арайила. 3. ЦIа гьечIеб кIкIуйги кIкIуй гьечIеб цIаги букIунареб. 4. ЦIа гьечIелълъуб кIкIуй букIунареб, лълъим гьечIелълъуб хьуцIцI букIунареб. 5. ЦIа рокъоб ккурай, бакъ рагъида ккурай. 6. ЦIа ссвараб цунтуралда кан бакизе кIоларо. 7. ЦIаги лълъимги асскIоб чIчIоларо, гьекъолдухъанассул чвантиниб гIарац чIчIоларо. 8. ЦIаги лълъимги гIадин рукIунге. 9. ЦIаго бакилалде, кIкIуй бахъарал. 10. ЦIагIел – дур, сакI – дир. 11. ЦIадаб бачIеб чед кунев Бигищ гIадин. Гъассда кIиябго рахъ кьеризабураб, жиги цIадаб бачIеб (тIаде цIа хъван бежизабичIеб) чедги корол хIамаялда базабун, цо гьитIинаб къваригIелалълъ къватIие ун йиго Бигищил чIчIужу. Гьагъаб параялда рокъове щварав Бигищ чед квине лIугьун вуго. - Вуйгь! Дуцца гьабулеб жо щиб, Бигищ, цIадаб бачIеб чед кунев! – ан чIчIужуялълъе кIудияб кеп щвараб меххалълъ, Бигищицца абун буго: - Рецц Аллагьассе буго! Унго, гьединищ иш букIараб! Валлагь-биллагь, дида ккун букIана дунго унтун ватилилан! 12. ЦIадабе бегьараб квер бухIичIого ххутIуларо. 13. ЦIадабе нарт тIолареб. 14. ЦIадул кутак лълъецца чIвалеб, загьрудал кутак даруялълъ чIвалеб, хIалхъублъиялълъул кутак ссунццаниги чIвалареб. 15. ЦIадулгун маххссара те, лълъадалгун божилъи те. 16. ЦIакъ ворххани, тIепула, тIепун чIчIани, ворххула. 17. ЦIакъ къвакIани, бекула, тамахлъани, гьетIула. 18. ЦIакъ лъала гIонкIкIода мугьал щолеб бакI. 19. ЦIакъ хIапулелълъ хIанчIулареб, ккун чIчIоларесс кьабулареб. 20. ЦIакъав чини вугоанила мун, дагьав гIантав гьечIевани. 21. ЦIакъалдасса цIакъаб жо камулареб. 22. ЦIакъго витIаравлъунги вукIунгейила, цIакъго гIакъилавлъунги вукIунгейила. 23. ЦIакъго гьаракь борххунги кIалъаге, кето гIадин, мимидизеги мимидуге 24. ЦIакъго гIакъилассул гьудулзаби дагьалила. 25. ЦIакъго гIемераб бечелъи бокьарав бугелдассаги ватIалъизе бегьула. 26. ЦIакъго рецц бокьулев ххадув беццлъизеги бегьулев, гIинкълъизеги бегьулев. 27. ЦIакъго рокьиялълъила катицца жиндирго тIанчIи кваналел. 28. ЦIакъго хIинкъарассда асскIореги къаларелила щайтIаби, ракI кьвагьун, гьев хвезе гурилан; цIакъав бахIарчияссда асскIореги къаларелила, жидеего зарал гьабиялда хIинкъун. 29. ЦIакъго чIухIарав чIвалев, унти баххчарав холев. 30. ЦIакъго эххеде ворххарав гIодов квеш речIчIулев. 31. ЦIаялде гIагараб гIарахъ бухIичIого ххутIулареб. 32. ЦIаялълъила цIа бакулеб. 33. ЦIел хIалтIи цIецца гурони гьабулареб. 34. ЦІеххезе чи щвечІони, хІохьода цІеххонги, цІеххечІого тогейила. 35. ЦIибаккараб босе, басралъун хвараб нахъе реххе. 36. ЦIиданделъарал росс-лълъади ругеб рокъобе илбис лIугьунаребила, базаралдеги бачун, бичилебилан хIинкъун. 37. ЦIида бацIцIунилан бацIицца бацIил гIамал толареб. 38. ЦIидалълъго раса-цIцIалкIу магIидайила. 39. ЦIиял башмакъазул къуцIи берцинаб, цIияй бахIаралълъул гIеретI гвангъараб. 40. ЦIияб жо лъималазда лъала, умумузда басриябги лълъикI лъала, цIиябги бихьула. 41. ЦIияб нух – цIияб рукъ. 42. ЦIияб ретIел ретIараб басрияб щайтIан. 43. ЦIиябги босе, басриялълъулги къимат гьабе. 44. ЦIиябищ, гьанже гьабурабищ? 45. ЦIиялълъ басрияб хисулеб, басиялълъ оц хисулеб. 46. ЦIубанагIан тIор гIодобе къулула, бечелъанагIан чи эххеде валагьула. 47. ЦIул бугони, гIащтIи камиларо. 48. ЦIулада бараххщун, цIа ссвине тарай, ЦIцIилцIцIида бараххщун, рукъ чорок тарай. 49. ЦIулада рекIараб цIа ссунеб, тIулида рекIараб цIа ссунареб. 50. ЦIулада цIа рекIани, бухIун лIугIула, ссуна, рекIеда рекIараб цIа кидаго ссунаро. 51. ЦIулакьодул гъотIода микьир бижуларо. 52. ЦIулалълъ рекъолареб канал ноцIцI гIадав, къадалI рекъолареб гьецIцIо гIадинав. 53. ЦIуна-къай гьечIезул къоял, чияда ццере квералги ккун, унелила. 54. ЦIуна-къай Ираналълъулгун даран-базаралдасса бергьунебила. 55. ЦIуна-къай къарумлъи гуро. 56. ЦIуна-къараб жоялълъе къо камулареб. 57. ЦIураб гIертIинибе лълъим тIолареб. 58. ЦIураб рагIинибе лълъимги тIоге, лълъеда накъищги бахъуге. 59. ЦIуралълъухъ цIураб кьолеб жойила гIорто. 60. ЦIураххинкIазулцин лълъикI гурила бо.
- p | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
г g 1. Габур бугони, рукь камиларо. gabur bugoni, rup kamilaro. 2. Габур хъазилай, хъвата гIакдалай. gabur ]a#ilay, ]wata fakdalay. 3. Габур тIерен, тIоноцIцI бегIер. gabur Teren, Tono~ befer. 4. Гагу хунилан, хур бекьичIого толареб. gagu [unilan, [ur bepizogo tolareb. 5. Гагуги Мадинатги гIадин. gagugi madinatgi fadin. 6. Гажаз бессаралдасса квераз бессараб лълъикIабила. ga$a# beSaraldaSa kwera# beSarab :ijila. 7. Гажал гьечIеб бацI букIунареб, квач гьечIеб ххасел букIунареб. ga$al hezeb ba` bujuneb, kwax hezeb {asel bujunareb. 8. Галицца буххун, ралъад лIугIулареб. galiCa bu{un, ra;ad /ufulareb. 9. Гама лълъикIаб букIиналълъ ракъдада хьвадуларо. gama :ijab bujina: raqdada %wadularo. 10. ГамачI гебегунилан, мугIрул багьа холареб, бахIри чапдонилан, ралъдал лълъим хъублъулареб. gamaz gebegunilan, mufrul baha [olareb, ba\ri xa_donilan, ra;dal :im ]ub;ulareb. 11. ГамачI гIедегIуларо, гIадан хIал ккун чIчIоларо. gamaz fedefularo, fadan \al Kun Zolaro. 12. ГамачI речIчIаниги, руз холеб, ганчIилI речIчIаниги, руз холеб. gamaz reZanigi, ru# [oleb, ganzi/ reZanigi, ru# [oleb. 13. ГамитIаги вукIун, гамихъангун вагъуге. gamiTagi wujun, gami]angun wafuge. 14. Гамихъангун кьал гьавуге, кьурулIа на бахъуге. gami]angun pal hawuge, puru/a na ba]uge. 15. ГанчIал рухьун, гьаби риччан. ganzal ru%un, habi riXan. Аби гIунтIизабула магIарухъе вачIун вукIарав гIарабассде. abi funTi#abula mafaru]e wazun wujaraw farabaSde. Жидерго гIадамаз гьессда гьикъарабила Дагъистан кинаб бакI батарабилан. Гьессги абурабила, гьаби риччараб, ганчIал рухьараб бакI батанилан. ГIадамал кинал ругелан гьикъараб меххалълъги абурабила, цIцIад хIаллъани, роцIцIагиян гьардолел, роцIцIен ххалалъани, цIцIад багиян гьардолел, Аллагьассда малълъарулел чагIи ратанилан. $idergo fadama# heSda hiqarabila davistan kinab baj batarabilan. heSgi aburabila, habi riXarab, ganzal ru%arab baj batanilan. fadamal kinal rugelan hiqarab me{a:gi aburabila, ~ad \al;ani, ro~agiyan hardolel, ro~en {ala;ani, ~ad bagiyan hardolel, allahaSda ma:arulel xafi ratanilan. - Дин? - din? - Динги гьабула, ссадакъаги кьола, лълъикIал гIалимзабиги руго. Цинги инсанассде бачIунеб балагьалълъул бищунго кIудияб жо хвел буго. Гьеб кIудияб къварилъи тIаде бачIараб къоялълъ хварассул хъизан, росс хварай лълъади, бессдаллъун ххутIарал лъимал, херал умумул – росуго тIаделъун, хIулун лъола. - dingi habula, Sadaqagi pola, :ijal falim#abigi rugo. cingi insanaSde bazuneb balaha:ul bi&ungo judiyab $o [wel bugo. heb judiyab qwari;i Tade bazarab qoya: [waraSul ]i#an, roS [waray :adi, beSdal;un {uTaral ;imal, [eral umumul - rosugo Tade;un, \ulun ;ola. ГIарабазул гьеб лълъикIаб нассихIат битIухъ гьабула жиндир заманалълъул кIудияв гIакъил, гIалимчи, кочIогьан Инххосса ГIалихIажияссул рагIабазги. faraba#ul heb :ijab naSi\at biTu] habula $indir #amana:ul judiyaw faqil, falimxi, kozohan in{oSa fali\a$iyaSul rafaba#gi. “Керен бухIулареб патихIа тIамун, АлхIам цIцIалилалде боцIцIул бицина. Будун-дибирилан дундун гьабила, Дунги варисилан цоги вачIина. Дуцца нахъе тарал дур ятимазул ТIутIун босун ина мискинаб боцIцIи. ДутIа бугеб налъи тIобитIилалде, ТIанкIелаго лълъвина лайла бачине. МаржухIаб щиналда гIамалги гьабун, ХIал къвагъун реххила рукъалълъул агьлу!” 16. ГанчIидасса тIотIоегIан рукъалълъе пайда гьечIев. ganzidaSa ToToyefan ruqa:e _ayda hezew. 17. Ганщида данде баси балареб. gan&ida dande basi balareb. 18. Ганщида ххаххараб бече хIарщулI гебергахъдулебила. gan&ida {a{arab bexe \ar&ul geberga]dulebila. 19. Гаргадизе лъалеб гьечIони, гаргадичIого вукIинегIаги лъазе ккола. gargadi#e ;aleb hezoni, fargadizogo wujinefagi ;a#e Kola. 20. ГарцIцIида кколебила кинабго мегъ жиндирилан, къоркъода кколебила киналго лълъиназул иххтияр жиндихъилан. gar~ida Kolebila kinabgo mev $indirilan, qorqoda :olebila kinalgo :ina#ul i{tiyar $indi]ilan. 21. ГарцIцIил кочIодасса найил зузуйго лълъикIила. gar~il kozodaSa nayil #u#uygo :ijila. 22. Гвавул роценги дие, роцадул тIеххги дие. gwadul rocengi diye, rocadul Te{gi diye. 23. ГвавулIе чу гьарани, хIамагIаги биччалеб. gwawu/e xu harani, \amafagi biXaleb. 24. Гважул хIал лъачIого, чолониб гIанкIкI къинлъулареб. gwa$ul \al ;azogo, xolonib fanJ qin;ulareb. 25. Гважуцца рачIчI хьвагIичIого, тула ххадуб унаребила. gwa$uCa raZ %wafizogo, tula {adub unarebila. 26. ГванзгIулбузе ххер барай, ххуххазе накку барай. gwan#fulbu#e {er baray, {u{a#e naKu baray. 27. Гванзаб хIал, хIораб ракь. gwan#ab \al, \orab rap. 28. Гванзкуйдул квилу кидадай бортилаян ххадуб бекерулеб цер гIадин. gwan#kuydul kwilu kidaday bortilayan {adub bekeruleb cer fadin. 29. Гебергизе хIур гурила, хIанчIизе заз гурилан, магIарде гъураб хIама лIутун бачIарабила. gebergi#e \ur gurila, \anzi#e #a# gurilan, mafarde vurab \ama /utun bazarabila. 30. Гени-гIеч гъоркьа тIаде аххирулебила, ххурма-цIулакьо тIассагъоркье аххирулебила. geni-fex vorpa Tade a{irulebila, {urma-`ulapo TaSavorpe a{irulebila. 31. Гени чIван, гIеч бищуге. geni zwan, fex bi&uge. 32. Гени чIван, гIеч чIван, гьабураб магIишат аххирги пасалъула. geni zwan, fex zwan, haburab mafi^at a{irgi _asa;ula. 33. ГермитIа бараххщарай къоролалълъ квен лIугIизегIан хIама цIулал бухIарабила. germiTa bara{&aray qorola: kwen /ufi#efan \ama `ulal bu\arabila. 34. Гирулеб гьецIоялда хIет бижулареб. giruleb he`oyalda \et bi$ulareb. 35. Гирун унеб эбелалълъул ракIалълъ гьикъарабила - вай, дир ххирияв вас, цIакъ унтарабищ, талихI кьун воххаяв, квеш тункарабищ? girun uneb ebela:ul raja: hiqarabila - way, dir {iriyaw was, `aq untarabi&, tali\ pun wo{ayaw, kwe^ tunkarabi&? 36. Гогьав херассдассаги цIунагийила, гьитIинго херлъарав гIолилассдассаги цIунагийила. gohaw [eraSdaSagi `unagiyila, hiTingo [er;araw folilaSdaSagi `unagiyila. 37. ГодекIан лълъикIаб жо, хIикматал щвани, хIалихьатал чагIалI гIодор чIчIечIони. godejan :ijab $o, \ikmatal &wani, \ali%atal xafa/ fodor Zezoni. 38. ГодекIаниб бицине бегьулареб жо чIчIужуялда бицунге. godejanib bicine behulareb $o Zu$uyalda bicunge. 39. ГодекIаниб кIал цIуне, чияр рокъоб бер цIуне. godejanib jal `une, xiyar roqob ber `une. 40. ГодекIаниб лълъикIаб жо миккихIехьила. godejanib :ijab $o miKi\e%ila. 41. ГодекIаниб тIом биххани, бетIергьанчияссе тIукъби камулел. godejanib Tom bi{ani, beTerhanxiyaSe Tuqbi kamulel. 42. ГодекIанив гуревила бахIарчи лъалев, рагъдайила. godejaniw gurewila ba\arxi ;alew, ravdayila. 43. ГодекIанив къварид гьавурасс, дикьа къолей рокъой йигилан, чIчIужу юххарайила. godejaniw qwarid hawuraS, dipa qoley roqoy yigilan, Zu$u yu{arayila. 44. ГодекIанив цIакъав гIалххуда вагъуларев. godejaniw `aqaw fal{uda wavularew. 45. Гозо ссверичIеб жоялълъ гьан кунареб. go#o Swerizeb $oya: han kunareb. 46. ГорботIа рокьо гурев, рукьалтIа цедер гурев. gorboTa ropo gurew, rupalTa ceder gurew. 47. Гордал рагьиларилан чIчIарасс нуцIцIа рагьизе кколеб. gordal rahilarilan ZaraS nu~a rahi#e Koleb. 48. Гордухъан бачIараб, гордухъан унеб. gordu]an bazarab, gordu]an uneb. 49. Горил рагIал гьечIеб, рагIул аххир гьечIеб. goril rafal hezeb, raful a{ir hezeb. 50. Горо чIахIиял жалила лъимал. goro za\iyal $alila ;imal. 51. ГохIда гьабун, хIор чIчIолареб, къан хIамил рачIчI букIунареб. go\da habun, \or Zolareb, qan \amil raZ bujunareb. 52. ГудратIа моххмохх гурони, чIобого кьолеб жо букIунареб. gudraTa mo{mo{ guroni, zobogo poleb $o bujunareb. 53. ГудратIа тIатIи гIункIкI гIорцIцIизе гуребила балеб, гIункIкI кквезейила. gudraTa TaTi funJ for~i#e gurebila baleb, funJ Kwe#eyila. 54. ГудратIе ккани, гъалбацIги кколебила. gudraTe Kani, valba`gi Kolebila. 55. Гулгун хурибе инаро, ххума чIарадиларо. gulgun [uribe inaro, {uma zaradilaro. 56. Гула-ххер гьечIони, чан щоларо. gula-{er hezoni, xan &olaro. 57. Гулида гIанкIкIги речIчIулеб, гIанкIкIида гулаги речIчIулеб. gulida fanJgi reZuleb, fanJida gulagi reZuleb. 58. Гулида ХIажимурад лъаларо. gulida \a$imurad ;alaro. Цо нухалълъ Шамилил наиб ХIажимурадида тIаде гула балеб букIун буго. ХIажимурадида гьикъун буго - «Щай мун, цIакъав бахIарчи, гулидасса ваххчарав?» – ан. ХIажимурадицца гьадаб къокъаб жаваб кьун буго. co nu]a: ^amilil naib \a$imuradida Tade gula baleb bujun bugo. \a$imuradida hiqun bugo - "&ay mun, `aqaw ba\arxi, gulidaSa wa{xaraw?" - an. \a$imuradiCa hadab qoqab $awab pun bugo. 59. Гулицца цояв чIвала, мацIцIалълъ нусгояв чIвала. guliCa coyaw zwala, ma~a: nusgoyaw zwala. 60. ГунащмагIна гьабуге, битIаралълъе нух биччай. guna&mafna habuge, biTara:e nu[ biXay. 61. Гурга кварал, чед кварал чиядаго рагIичIо, цо квараб дир макари годекIаниб лъун буго. gurga kwaral, xed kwaral xiyadago rafizo, co kwarab dir makari godejanib ;un bugo. 62. Гургинаб тIад чIчIолареб, чIчIинтIараб гирулареб. gurginab Tad Zolareb, ZinTarab girulareb. 63. Гурде хIебтил букIаниги кIваричIо, хIара меседил бугони. gurde \ebTil bujanigi jwarizo, \ara mesedil bugoni. 64. Гурдида гурони, черххги бихьичIей, чаххтIида гурони, гъалги бихьичIей. gurdida guroni, xer{gi bi%izey, xa{Tida guroni, valgi bi%izey. 65. ГурдилI цIул гьабе, цIулалълъ гъабу гьабе. gurdi/ `ul habe, `ula: vabu habe. 66. ГурхIараб бихьугеги, хIинкъараб бачIунгеги! gur\arab bi%ugegi, \inqarab bazungegi! 67. ГурхIун гIоданиги, бухIун гIодизе ккогеги. gur\un fodanigi, bu\un fodi#e Kogegi. 68. ГурцIаб гIи хьихье, гIобаб цIцIе хьихье. gur`ab fi %i%e, fobab ~e %i%e. Бицен буго, гIухьби рукIаралила жидерго гIигун цо нохъода. Цойидассан нохъодул кIалтIуги тIун, гьел ххутIаралила жанирго. ГIухьбиги гIиги чIаго рукIин лъаниги, гIадамазул хIал гIечIебила, тIаде нух бахъун, гьел ххвассар гьаризе. ГIухьбузул гара-чIвари рагIулеб букIарабила, воре, гурцIаб гIиги хьихье, гIобаб цIцIеги хьихье, гьаб кIиялълъгогIан къо хIехьолеб жо гьечIилан. Кицилъун лIугьарал гьезул рагIабиги, гьез ахIулеб букIараб кечIги, гьез бачарабилан абулеб “Нохъода хваразул бакъанги” нилIер ххалкъалълъ нахъе цIунун руго. bicen bugo, fu%bi rujaralila $idergo figun co no]oda. coyidaSan no]odul jalTugi Tun, hel {uTaralila $anirgo. fu%bigi figi zago rujin ;anigi, fadama#ul \al fezebila, Tade nu[ ba]un, hel {waSar hari#e. fu%bu#ul gara-zwari rafulareb bujarabila, wore, gur`ab figi %i%e, fobab ~egi %i%e, hab jiya:gofan qo \e%oleb $o hezilan. kici;un /uharal he#ul rafabigi, he# a\uleb bujarab kezgi, he# baxarabilan abuleb "no]oda [wara#ul baqangi" ni/er {alqa: na]e `unun rugo. 69. Гучги жанги жо гуро, жанив дацци гьечIони. guxgi $angi $o guro, $aniw daCi hezoni. 70. Гучид ца бихьичIого, царад магъ хьвагIулареб. guxid ca bi%izogo, carad mav %wafulareb. keren bu\ulareb _ati\a Tamun, al\am ~alilalde bo~ul bicina. budun-dibirilan dundun habila, dungi warisilan cogi wazina. duCa na]e taral dur yatima#ul TuTun bosun ina miskinab bo~i. duTa bugeb na;i TobiTilalde, Tanjelago :wina layla baxine. mar$u\ab &inalda famalgi habun, \al qwavun re{ila ruqa:ul ahlu.
- t | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Чч X ЧчугIа кколессул роц лълъелIила букIине кколеб. Ччузе бокьулев, ххузе бокьуларев вукIунарев.
- kh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Ч x 1. Чабхъадул боцIцIи чабхъацца унеб. 2. ЧагIиги чIвачIого, чуги хвечIого, хъала бахъулареб. 3. Чадикълъи бихьаниги, чиякълъи бихьугеги. 4. Чадил къимат гьабичIессда къо квешаб бихьулеб. 5. Чадихъ гьан бичарав, дур чара хваяв, Чохьоцца реххарав, дур чилъи хваяв. 6. Чадицца цIунилилан цIцIодорлъи гIодоб тоге. 7. Чали гъазихъацца кколеб, гъарим пакъирасс кколев. 8. Чалуххай чIчIужу россассеги йокьулейила, росдаеги йокьулейила. 9. Чан батIияв, чан тIекъав, чан гIажизав, чан гIабдал. 10. Чан бахIарчи къосарав кухIлу бугел бераца, каранзул кIичIал ричIун, жаниве ваккизегIан. Чан меседу къосарай, къачIарал васал рихьун, къвал байдал, борохь батун, хьолбода жемизегIан. 11. Чан боцIцIи гьечIев гIалим гIодов ххутIарав, чан боцIцIи гIемерав гIабдал гIаршалде вахарав. 12. Чан гьабизе бигьаяб жо буго, чилъи гьабизе захIматаб буго. 13. Чан гьитIинаб бетIералълъ кIудияб бетIер къотIараб, чан гьитIинаб къукъа кIудиялдасса бергьараб! 14. Чан гIакъил вугев гIабдалассул малълъалда гъоркь! 15. Чан гIалимассул гIелму мискинлъиялълъ каранда жаниб ххутIараб! 16. Чан жагьилав гIабдал боцIцIуцца жаниве вачарав! 17. Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасса чи тIурулеб, чан зарараб жо бугеб, жиб тун чи вукIунареб. 18. Чанаре рачиналде гьаби кваназаруларел. 19. Чанахъанассул гьан биццатаб, гьабигьанассул чед биццатаб. 20. Чанахъанассул пишаялда баракат букIунареб. 21. Чангит барабщинаб чу букIунаро, чухъа ретIанщинав чи вукIунаро. 22. Чанго бихьичIого, рохьобе туманкI (ГIила гьечIого чияда гIайиб чIваге). 23. Чание мегIер лълъикIаб, чодуе авлахъ лълъикIаб. 24. Чанил бице чанахъанассе, чол бице чотIахъанассе. 25. Чаницца кьуру тун буго. 26. ЧанцIцIул борцаниги, хIамил рачIалда цого натIила. 27. Чара хвани, лочноцца гъадилгун чан гьабула. 28. Чаран къвакIула бацIанагIан, бахIарчиясс къо хIехьола хIал цIцIикIкIанагIан. 29. Чаран мугъалде ккун буго. 30. Чаранги биунеб, цIел хIал батани, гамущги меххтулеб, гIемер гьекъани. 31. Чаргъеду парххунилан, бакъул нур ссвинаро. 32. Чарухъаз гьабун, чакмабаз кваналеб заман бачIун буго. 33. Чахъаби ругони, вехь камиларо. 34. Чахъабиги цIунун, бацIалги гIорцIцIун. 35. Чахъдал къинлъиялдасса куйдул багьлъи бергьунеб. 36. Чахъдал тIом ретIараб чакъал гIемераб. 37. Чахъдал цIцIолъи бихьидал, цIцIе белъарабила. 38. Чахъдацца цIцIараб цIцIеде бачунге. 39. Чахъу гIорцIцIулареб, гIорцIен къинлъулареб. 40. Чахъу чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги багIарабила. 41. Чванта тIадагьлъани, гьудулзаби дагьлъулел. 42. Чвантида кIулал рарав. 43. Чвантиниб гIарац бугони, магIардаги ах гьабулеб. 44. Чвантиниб гIарац бугони, эбелалълъул къвалакьа яхъунги, яс кьолейила. 45. Чвантиниб гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIащтIи кодоб гьечIого, рохьове инго лълъикIаб. 46. Чвантиниб месед бугони, росулI яс камуларо. 47. Чваххулеб лълъадае нух камулареб. 48. Чваххун балеб цIцIад гIадав, щун бачIунеб гIор гIадав. 49. Черхх херлъаниги, ракI херлъулареб. 50. Черххалда гIакъуба бихьичIони, чехьалда рахIат бихьулареб. 51. Черххалда ракI чIчIоге, чи данде ккезе гурин! 52. Черххалда хIур бахинчIони, хIарччида нах бахунареб. 53. Черххалдасса гIорцIцIуге, къуваталдасса чIухIуге. 54. Черххалълъул цIцIайи цIцIадирабаз бицуна, чилъиялълъул цIцIайи мацIцIалълъ бицуна. 55. Чехь бакъарав, рукъ мискинав – умумузул къо-ассалдаса чIухIарав. 56. Чехь бакъунилан, рукъи балареб. 57. Чехь бухIуларессде рекIел ургъел бикьуге. 58. Чехь бухIун гIодани, беццаб бадиссаги магIу бачIунеб. 59. Чехь бухIун ракIалда ккураб жо киданиги кIочонареб. 60. Чехь гIорцIцIаниги, бер гIорцIцIуларев. 61. Чехь гIорцIцIарав – бер бакъарав, рукъ бечедав – ракI мискинав. 62. Чехь квешай кIалалълъе ккогеги, кIал квешай мадугьалихъе ккогеги. 63. Чехь квешасс рукъги бичулеб, ракI квешасс боги бичулеб. 64. Чехь сабаблъун бетIер ссуризе тогейила. 65. Чехь сабаблъун бетIер хварав бетIеркъотI. 66. Чехь цIезегIан кванаялълъ кIкIухIаллъи тIад гьабулеб. 67. Чехь чIвалеб жо – квен, черхх чIвалеб жо – рахIат. 68. Чехьалда рихараб жо нус гурони гьечIебила. 69. Чехьалълъ бетIер какарав бетIеркъотI. 70. Чехьалъеги черххалъеги бокьанщинаб гьабуни, чи бокьове ккола. 71. Чи вихьун, квен кьурал, чу бихьун, хер кьурал. 72. Чи вихьун, чухъа гьабе, гьудул вихьун, ракI рагье. 73. Чи вуххуге – малълъе, чу буххуге – кIалцIи бай. 74. Чи гурессда гьаруге, дурго хIурмат хунгутIизе. 75. Чи гьечIелълъув гIакъиллъун вукIиналдасса гIадамазда гъорлI гIабдаллъун вукIинго лълъикIила. 76. Чи гIемер – чи дагь, чу гIемер – чи дагь (Нагагь гурони, чу батуларо, надир гурони, чи ватуларо). 77. Чи гIемералълъуб гIакълу цIцIикIкIараб. 78. Чи гIемерлъани, гIадлу холеб. 79. Чи даражаялде, захIмат бихьун, вахунев, гIодове бигьаго кколев. 80. Чи къварид гьавурав воххун ххутIуларев. 81. Чи лъала рагIудассан, чу лъала рилълъадассан. 82. Чи лъазе бокьани, гьессие хIакимлъи кьейила. 83. Чи лъазе бокьани, гьессул гьалмагъассухъ ралагьейила (Чи лъазе бокьан, гьудул цIеххе). 84. Чи лъалилан абуге, лъороб гьецIцIо батизе гурин. 85. Чи чохьоццайила мискин гьавулев. 86. Чи хвезе бегьулев жинда чилъун вихьуларев чияссдассанги, чи хвезе бегьулев жинда жолъун бихьулареб унтиялдассанги. 87. Чи чIваларилан кьалги гьабуге, чу ссвакаларилан ахIудги рахъунге. 88. Чи чIван, балагьги бачIунгеги, чияда ццере къулизе ккарал къоялги рачIунгеги. 89. Чидай хIелиялдасса вакъи рекъон букIуна, яхI тун хьвадиялдасса къадру рекъон бихьула. 90. Чилъун лIугьине гIумруги дагьаб. 91. Чилъун лIугьинеялдасса гІалимчилъун вахъине бигьаябила. 92. Чини лъалин, ракI лълъида бихьулеб? 93. Чирахъ баканиги, чIчIужугIадан гьечIеб рукъалда нур букIунаребила. 94. Чирахъ гьечIеб рукъ – хIайван гьечIеб бокь. 95. Чирахъул канлъи гIоларессе бакъул канлъиги гIолареб. 96. Чияда базе бигьаяб жойила зигара. 97. Чияда бицараб жо – росдадаго лъараб жо. 98. Чияда божараб карщ лълъамияб букIуна. 99. Чияда велъуге, дудаго бадибчIвай бихьизе гурин. 100. Чияда гьардоге, дуццаго гьабе, гIедегIуге, лълъикI гьабе. 101. Чияда гьикъарав – гIакъил, гIакъилассда нахъвилълъарав – цIцIодор. 102. Чияда гьикъаралълъе дуцца жаваб кьоге - «ГьикъичIогобиц», – ан дудаго цIцIар лъолеб. 103. Чияда зигара базе инчIев жиндирго къварилъигун ххутIулев. 104. Чияда кверщел гьабизе лIугьарав лълъиего вокьуларевила. 105. Чияда ццебе хъат кквеялдасса хъирул къоно тIад байго лълъикIаб. 106. Чияда ццебе хъат ккурасс черхх бичула, чияе наку чIварасс намус бичула. 107. Чияда – цедер, дудаго – рокьо. 108. Чиядасса тIокIлъарассул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар бугев ххашазе тушманлъула. 109. Чияде абулелълъул, дурго эбелалълъулги пикру гьабе. 110. Чияде хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб. 111. Чияе бухъаралълъуре нилIго кколел. 112. Чияе гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек. 113. Чияе гьересси бицарасс дуеги бицунеб, чияе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб. Искандар Зулкъарнайидаги Дарвануш абулев хханассдаги гьоркьор ккаралила кIикъого къоялълъ гьоркьосса къотIичIел роркьарал рагъал. Дандеяссул къуват цIцIикIкIараб меххалълъ, Искандар хIилаялълъе ургъизе ккаравила. Искандарицца, цIцIикIкIараб къадар гIарац-месед кьезе къотIиги гьабун, Дарванушил кквезе щварав божарав гьалмагъ тIамуравила гьессда хвалил ругънал лъезе. Боги биххун гъоркь ххутIарав Дарвануш хханассда Искандарицца абурабила - «Рецц Аллагьассе, дир квердассан гурев, дурго бищун божарав гьалмагъассул квердассан мун холев вукIин!». Дарванушица абурабила - «Дун дуда тIасса лIугьана, лълъикIав бахIарчи, диени ххиянат гьабурасс дуеги ххиянат гьабизе бугебхха!». ГьебсагIаталълъго Искандарицца ххиянатчи гьессул хханассда ццевеги вачун чIваравила. 114. Чияе ккараб къварилъиялдасса воххарав ххалат воххун ххутIуларев. 115. Чияе нассихIат гьабун, дуццаго мунагь гьабуге. 116. Чияе рагIи бицунге, бицун ххадуб хвезе тоге. 117. Чияе хвел гьаричIого, дуего гIумру гьаре. 118. Чияеги гьабе, дуего гьабизеги кIочон тоге. 119. Чиякъасс ургъел катиде бикьулеб, вехьасс ургъел гьойде бикьулеб. 120. Чиякълъиялдасса чадикълъи лълъикIаб. 121. Чиякълъун чи ххутIугеги. 122. Чиякьа мунго къезе ххиянат гьабуге. 123. Чиякье кIалги ккоге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гьоркьоссанги раккуге. 124. Чияр бадибе унеб рас бихьулев, жиндирго бадибе унеб чIалу бихьуларев. 125. Чияр бакI бихьичIого, нилIералълъулго къимат лъалареб. 126. Чияр бакIалде араб лочнол нилIерго бакIалда бугеб гъадилгIан къимат букIунареб. 127. Чияр бахъухъалдасса нилIерго ххинкI лълъикIабила. 128. Чияр бихьизе – канав, жиндирго бихьизе – беццав. 129. Чияр бицин буго чияр гьан кванай. 130. Чияр бициналде дургоги пикру гьабе. 131. Чияр боцIцIиялда баххиллъизе бегьулареб. 132. Чияр боцIцIутIа бер биххуге. 133. Чияр васассдасса нилIерго яс лълъикI. 134. Чияр гьанадасса нилIерго гьуэр лълъикIаб. 135. Чияр гьорохъе кьурдуге. 136. Чияр гIадалI къараб чIор – гIеркъилI къараб чIор. 137. Чияр гIайиб ккола бачIараб балагь, нилIер гIайиб ккола бачараб балагь. 138. Чияр гIайибал рицунелълъул, мукъулукъ гIатIидав, жиндирго гIайибал рицунелълъул, гIундул раххчулев. 139. Чияр гIакълу босулареб бетIералдассаги цIунаги, бетIер гьечIей чIчIужуялдассаги цIунаги. 140. Чияр гIачIар какилалде, нилIерго басидулги багьа гьабе. 141. Чияр жо бикъарассул квер цIцIогьорабила, чияр жо ккурассул кверги кIалги цIцIогьорабила. 142. Чияр жо чияе те. 143. Чияр квен гьуинав, чвантил кIал къваридав. 144. Чияр квен гьуинлъугеги, чияр рукъ гьуинлъугеги. 145. Чияр кверацца мичIчI бетIизе бигьаяб жойила. 146. Чияр квеш бихьараб тезе кIваги. 147. Чияр кумекалде хьул лъоге, хIалтIун балагье. 148. Чияр куц-бегIалълъул бициналде цин матIуялълъуве валагье. 149. Чияр къварилъи жиндего бачIиндалила бичIчIулеб. 150. ЧIияр къимат гьабуларесс жиндиргоги гьабулареб. 151. Чияр кIиго шагьи ккурав чияссул багьа – кIиго кепек. 152. Чияр мажгиталълъуб как ахIулареб. 153. Чияр маслихIаталълъ росс-лълъади рекъон чIчIоларо, гъоркьагьобоги тIассагьобоги гIадин, цоцалI ххенон, жалго рекъон ккани гурони. 154. Чияр мегеж кквелалде, дургояб къунцIейила. 155. Чияр нахуде хьул лъун, нахударахъал гьаруге. 156. Чияр оц кваналевилан дирго ссан кваналев ватана. 157. Чияр рагIи – тIохде балеб цIцIад (РагIи – къватIиб, дун – рокъов). 158. Чияр ракьалда хханлъун вукIинегIан, нилIерго ракьалда узденлъун вукIинго лълъикI. 159. Чияр ракьалда чи беццав. 160. Чияр ракI релъиледухъ, накуги чIваге, чи чилъун вихьичIого, гьаваялдеги вахунге. 161. Чияр ригьиналда гьоркьове, гIабдал гурони, лIугьунаревила. 162. Чияр риди рахьилан ккогеги, рагьтIа гIака гьечIого ххутIугеги. 163. Чияр рокъоб квен тIагIамабила. 164. Чияр рокъов вугониги, чи лъала, чияда гъоркь бугониги, чу лъала. 165. Чияр рокъов дегIенлъунги вукIунге, дурго рокъов цIцIелъунги вукIунге. 166. Чияр ролIул чедалдасса нилIерго мочол гурга лълъикIаб. 167. Чияр ссадакъаялде саххаватго хьвадулев, жинццаго къватIибеххун къараб гурга кьоларев. 168. Чияр ссурукъ бихьараб дуццаго гьабуге. 169. Чияр тIагъур бахъани, нилIерабго къвалакь кквезе ккола. 170. Чияр хурибе рак баге. 171. Чияр цIакъалдасса нилIерго къадараб лълъикIаб. 172. Чияр цIцIоб батуларо, лълъадал нах бахъуларо. 173. Чияр цIцIоб – лълъадал щар. 174. Чияр цIцIобалде ккогеги. 175. Чияр чода рекIарав ххеххго рещтIуневила. 176. Чияр чода рекIарав хIарщукъотIнов рещтIунев. 177. Чияр чороклъи бихьизабулеб килищ бацIцIадаб букIине ккола. 178. Чияр чурпадулIе цIцIам жинццаго тIамизе те. 179. Чияр чIчIужу берцинайила, чияр чу цIакъабила. 180. Чияраб ссурун бихьун, нилIго кантIаги. 181. Чияралда бер биххарав, жиндирабго цагъриниб лъурав. 182. Чияралда хъваге, дурабго цIуне. 183. Чияразул бицунаго, дургоязулги пикру гьабе. 184. Чияргун гIахьалаб гIаладай, дунго бетIергьанаб хIамадай? 185. Чиясс дуе лълъикIлъи гьабуниги, квешлъи гьабуниги, гьелда нахъа цо гъваца батулебила. 186. Чиясс чи кIодо гьавуни, кIиялго кIодолъулел; чиясс чи инжит гьавуни, кIиялго инжилъулел. 187. Чияссда рекъаралила ишалги рукІунел. 188. Чияссдасса гьессул рагIад ххалатабила, гьессул гьунаралдасса рецц-бакъ борххатабила. 189. Чияссе гьабураб лълъикIлъиялдасса кIудияб ссадакъа гьечIебила. 190. Чияссе – гIамал берцинлъи, къохьое – нах, ратIлие – цIуни. 191. Чияссе – рагIи, хIамие – тIил. 192. Чияссе ссундулго гIей гьечIебила. 193. Чияссул бахIарчилъи борохь чIвазеги къваригIунеб. 194. Чияссул бахIарчилъи – ссабру гьабизе кIвей. 195. Чияссул чилъи жиндирго хъатикь букIунеб. 196. Чияссул гIамал хIакимлъун ккедалила лъалеб. 197. Чияссул ияхI – носол бал гIадаб жо. 198. Чияссул квешаб гIамал бахунеб унтиялдасса квешаб. 199. Чияссул къунтIаб гIамал-ххассият цо рагIудассанги бичIчIулеб. 200. Чияссул кьучIлъи – рагIи, рагIул кьучIлъи – тIубай. 201. Чияссул кIодолъи рарал соназулI гуребила букIунеб, гIакълуялълъулIила. 202. Чияссул хвел чияда бараб гьечIеб. 203. Чияссул хвелгицин берцинаб букIине ккола. 204. Чияссул тушманила жиндаго лъалареб жо. 205. Чияхъе тIагIел кьезе рокъотел виччай. 206. Чияцца гьабичIелълъул бициналде, дуццаго гьабуралълъулги багьа гьабе. 207. Чияцца гьабуралълъе къимат кьезе цIакъ бигьаяб жойила. 208. Чияцца гьабуралълъул гурони, жинццаго гьабуралълъул рогьо букIунарев. 209. Чияцца гьавун, чи лIугьунарев, жинццаго живго лIугьинавизе кколев. 210. Чияцца гьумер бухIизегIан, цIадуцца мегеж чIурхIаги. 211. Чияцца гIакълу малълъун, гIабдал цIцIодорлъуларо. 212. Чияцца кьураб бищунго лълъикIаб жо – гьáричIого кьураб жо. 213. Чияцца кьураб жа гьекъеялдасса живго бетIергьанаб лълъадал рагI гьекъей лълъикIаб. 214. Чияцца чи инжит гьавуларо, цин жинццаго живго инжит гьавичIони. 215. Чияццаниги кваналел Хъилидал багIаргIечал нилIеццаго кванан лълъикIила. 216. Чода рекъаралила тIукъбиги чIвалел. 217. Чода чIвалел магIазул гъанссида чIвалел магIал гьарурав Аллагь! Маххукъебедассул йикIун йиго цIакъ берцинай чIчIужу. Хханассе бокьун буго, гьелълъул россги тIагIинавун, жинццаго гьелдассан кеп босизе. Хханасс лъазабун буго къебедассда, метер радалалде нусго чодуе тIикъва-магI къотIичIони, жинцца мун чIвазе вугилан. Маххукъебедасс рокьукъаб ххабар чIчIужуялълъе бицун буго, кIвелародай рухI ххвассар гьабизеян хIалтIизе къассдги гьабун буго. ГIакъилай чIчIужуялълъ гьессда абун буго - дудассан тIалаб гьабулеб буго инсанассухъан гьабун бажарулареб жо. РачIа, къасси нилI регилин, метералде щиб бугониги ккелеб батила. Цониги магIги къотIичIого, росс-лълъади регун руго. Радакь, нуцIцIидаги тункун, хханассул нукарасс абун буго - «Ххан хун вуго, ххеххго гьессул гъанссида чIвазе магIал къотIизе тIаде вахъа», – ян. Маххукъебедасс гьурмада квер бахъун буго, ццереххун реххссарал рагIабиги абулаго, гъанссида чIвазе магIалги гьарун руго. 218. Чодасса гьоко ццебе унеб. 219. Чодасса рещтIун, хIамида рекIун. 220. Чодуе – цIцIал, хIамие – хIенссеркIо. 221. Чое – кьили, хIамие – гъалдибер. 222. Чое хъулухъ гьабичIони, лъелго рилълъине ккола, хIама лълъикI хьихьичIони, рохь мугъалълъ баччизе ккола. 223. Чол жал кколебилан, хIамил рачIчI ккоге. 224. Чол къимат лъаларев лъелго вилълъине кколев. 225. Чол хIал, гъогъолIе бачани, лъала, чияссул хIал, сапаралде цадахъ ккани, лъала. 226. Чордезе бокьарав лълъекьа хIинкъуларев, хIалтIи бокьулев бокьун вегуларев. 227. Чорххое рахIат гIемер гьабурав нахъа воххуларо. 228. Чорххол гьава цIцIикIкIарав цо хIалалда ххутIуларо. 229. Чорххол гIамал хисугеги, рекIел гIадлу биххугеги. 230. Чорххол гIамал хисугеги, хурул талихI бекугеги. 231. Чорххол сахлъи бараб буго роццада кванаялда, рукъалълъул ракIа-раххари – босаралълъуб босараб лъеялда. 232. Чорххол тIабигIат буго, керен тIуни, батIалъун чIчIолеб, тIечIони, кидаго хахулеб лъимер гIадаб жо. 233. ЧорххолI бугонани, нилIерго рухIги, махIалда бугони, нилIерго хIалги. 234. ЧорххолI бугони – рухI, чвантиниб бугони – гIарац. 235. ЧорххолI бугони – хIал, рокъоб бугони – махIал. 236. ЧорххолI витIарассе кинабго квен татуяб. 237. ЧорххолI витIи гIадаб чода чи рекIунарев. 238. ЧорххолI гьечIеб гьунаралълъ чи ццеве тIун инаро. 239. ЧотIахъанасс чу беццулеб, векьарухъанасс оц беццулеб. 240. Чохьое ияхI гьечIев, ракъуе ссабру гьечIев. 241. Чохьоеги рихьиеги бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколел. 242. Чохьол бухIиялда щибго релълъунареб. 243. Чохьол гурони, мацIцI лъаларев, чадил гурони, бицунарев. 244. Чохьол гьудулзаби чанги ратулел, къваригIиндал гьудул дагьав ватулев. 245. Чохьол дару – гьан, гьанал дару – рокьи. 246. Чохьол унти тIад чIвани, ботIрол унти тIагIуна. 247. Чохьол ургъел гьабуларесс ботIролги гьабулареб. 248. Чохьониб гьунареб кIалдибги гьунареб. 249. Чохьоцца гIадин, чи реххуларо. 250. Чоцца хIатIал росулел, тIад рекIарассухъ ралагьун (Чоцца юргъаги бачунеб, чи вихьун). 251. Чоцца чал кIанцIидал, оцоеги баркала кье. 252. Чоцца чи хIурулI речIчIулев, гIорцIмацца гъогъолI речIчIулев. 253. Чу берцин гьабула кьилиялълъ, чи берцин гьавула захIматалълъ. 254. Чу щведал, кьили щвечIо, кьили щведал, чу щвечIо. 255. Чу беэдун квегъе, чIчIужу еццун куцай (Чу беэде, чIчIужу ецце). 256. Чу босе гьод къокъаб, гьалмагъ ккве калам дагьав. 257. Чу босе, юргъа бихьун, налъи гьабе, чи вихьун. 258. Чу босулесс гьелълъул рилълъин цIеххедал, чол бетIергьанасс абурабила мавлидалде ахIун унев дибирассулалдасса ххеххаб бугилан. 259. Чу гьечIелълъуб хIамаги чуйилан толебила (тейила) 260. Чу, кIалдиб ххер ккун, холеб, къарум, дунялалда ххутIанщиналда ххадув ххачадулаго, холев. 261. Чу лъала, кьолокье ккедал, чи лъала, кьалде ккедал. 262. Чу лълъикIаб чияцца рекIинчIеб, лълъади лълъикIай чияе инчIей. 263. Чу лълъикIасс чодуе хIалхьи толареб, ретIел лълъикIав хьвадулев чIчIоларев. 264. Чу рилълъадассан лъала, чи рагIудассан лъала. 265. Чу хIалае ккун, хIамие кIалцIи щварабила. 266. Чу щолаго, гIорцIен гIабдаласс гурони рекIунареб. 267. Чу щолебги букIун, хIамихъ анищ гьабуге. 268. Чу-ярагъ лълъикIавилан, лълъиданиги цIцIар лъоге, лъалабалъги ратулел тадбир бугел гIадамал. 269. Чуги чIвачIого, чиги чIвачIого, хъала бахъулареб. 270. Чуги ццебе тун, лъалкI балагьулев. 271. Чуги цIцIалги гIола гIолохъанчияссе. 272. Чудкие балкан кинаб бугониги батIалъи букIунареб. 273. Чундузул убуразулI лIар биццатаб бис гIадав, лъарал лълъимазда гьоркьов хъахIилаб ралъад гIадав. 274. Чури бухIараб бахIри гIадин. 275. Чурпадул хIал гъодода лъала. 276. Чурул росода чIван, чIулгIи бекуге (Чи гурев чияссе кьун, лълъикIай яс хвезаюге). 277. ЧурулIа бахъараб гIункIкI гIадин. 278. Чурунилан щагIил чини лIугьинаро, чол русснада бухьунилан, хIамил чу лIугьинаро. 279. Чухъида квер бахъула, хъабчиде квер хьвагIула. 280. Чуял гIемер руго – тулпар цо буго, гIадамал гIемер руго – бахIарчи цо вуго.
- th | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ХI \ 1. ХIабургъараб гъуй гъваридабилан кколебила. 2. ХIабургъараб меххалълъ гIор бахунареб. 3. ХIайван кIал гIебаб лълъикIаб, гIанкIу гозо бегIераб лълъикIаб. 4. ХIайван – тIассан чараб, гIадан – жаниссан чарав. 5. ХIайван хвани - ракьа, чи хвани - ишал. 6. ХIайван хIайваналда релълъараб, гIадан гIадамассда релълъарав. 7. ХIайваналда ччехI ккани, риидал кьаралъула, рукъалда ччехI кканани, чанги сон къваригIуна. 8. ХIажалъиялълъ малълъула, магъалоялълъ квегъула. 9. ХIажат гьечIеб ххабаралда ххадувги лIугьунге, кколареб ишги бетIералде босуге. 10. ХIажизабазулги рещтIунгегийила бо. 11. ХIажигIисал хъулухъ. Кици бижун буго наибассул гьобол ХIажигIиссал баркала гьечIеб хъулухъалда тIад. Наибассе бокьун букIун буго йокьарай гIадангун кIалъазе. ЦIакьго наибассе хъулухъ бацIцIад гьабулев чи хIисабалда, ХIажигIисса гьессдасса ватIалъун гьечIо. Наибассе йокьулелда кIалъазе рес ккун гьечIо. Гьединаб хъулухъалда авараз абула ХIажигIисал хъулухъан. Кколареб иш бетIералде босарав чияссдеги абула кIудияв ХIажигIиса вугилан. 12. ХIажияссул ракI ХIавал кIалдиб. 13. ХIайваналцин рагъизе тIами Аллагьасс гьукъараб жойила. 14. ХIакимассда ццевессанги унге, хIамида нахъассанги унге. 15. ХIакимзаби рихьидал, «рорчIами!» – ян вортулев, цогидазда бер чIвайдал, рихьичIеб ххвел гьабулев. 16. ХIакимассул витIи – чи ватIа гьавунгутIи. 17. ХIакъаб рагIиялълъул къимат холареб. 18. ХIакъги къоги – къарал бугъие. 19. ХIал бугев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодоссан. 20. ХIал бугев – кидаго ххан, хIаликъав – кидаго лагъ. 21. ХIал бугессул гIанкIудул хоноялълъ хIал гьечIессул гIурул хоно бекулебила. 22. ХIал гIоларев хIилаялълъ бергьунев. 23. ХIал гIолеб гьечIони, хIилаги бегьулеб. 24. ХIал кколареб гьудуллъи ххалат ххутIулареб. 25. ХIал лъаларев гьудул – бекичIеб цIулакьо (ХIал лъаларев гьудулги бекичIеб цIулакьоги цого жалила). 26. ХIал лъаларей чIчIужугIаданалда тIаде иналдасса рекIараб ххвалчада тIаде ин лълъикIила. 27. ХIал лъаларессухъеги кьогейила налъи, хIал лъаларессухъаги босугейила. 28. ХIал хъубал гIадамал рукIинчIелани, ракьалдаги алжан букIинаанила. 29. ХIалакъаб жоялълъул гьан кьарияб бакIалдасса лълъикIаб, кьарияб жоялълъул гьан хIалакъаб бакIалдасса лълъикIаб. 30. ХIалакъаб куйдул боххалдасса кьарияб чахъдал ратIа лълъикIаб (ХIалакъаб цIцIеялдасса кьарияб бурутIго лълъикI). 31. ХIалакъаб чахъдал гьаракь рагIулареб. 32. ХIалакъаб чол гьод ххалатаб, гьекъарав чияссул ххабар чIамучIаб. 33. ХIалакъаб чу – квешаб чу, кьарияб чу – лълъикIаб чу. ГIодор чIчIарал гIадамазда ццевессан анила цо рекIарав. - Чол цIакълъи! Берцинлъи! – ян киназго беццанила нухлулассул чу. - Долълъул кьаралъигихха, дир лъимал! – ан абунила тIириги канлъи бихьуларев херав чияссги. Канлъиги бихьулареб меххалълъ, дуда доб чу кьарияб букIин кин лъарабан абигун, кIудияв чиясс гьадаб кици тIамун буго. 34. ХIалалав вакъуларо, бикъарав гIорцIцIуларо. 35. ХIаликъассул рагIи кIудияб, къокъассул гIамал кIудияб. 36. ХIалил хIалтIиялълъ черхх чIвалеб, хIалтIуларесс рукъ чIвалеб. 37. ХIалимаб чахъу лъабцIцIул къунцIулебила. 38. ХIалимассда къвал бай, къел кколев довегIан те. 39. ХIалимассе хъиру гIадав, хъачIассе квасквас гIадав. 40. ХIалихьалъиялда цадахъ хIалихьалъи хьвадулебила, бихьинчилъиялда цадахъ бихьинчилъи рекъолебила. 41. ХIалихьатав васассдасса, гьевги хун, чIчIикIараб бахъухъго лълъикIила. 42. ХIалихьатав ватидал, чияссе гьабизессеб тамихI – реххунтей. 43. ХIалихьатав гьудулассдасса бахIарчияв тушманго лълъикIила. 44. ХIалихьатаб гьой чурутIа багъула, хIалихьатав чи гъасстIа вагъула. 45. ХIалихьатав ххан ккани, улка биххулеб, хIалихьатав гIел ккани, магъил гIадлу биххулеб. 46. ХIалихьатав чияссда хIал лъазе тоге. 47. ХIалихьатав чияссухъа босараб хханида жаниб багIархоно батуларебила. 48. ХIалихьатассул рекIелI – ххиянат, бахIарчияссул рекIелI – ритIухълъи. 49. ХIалицца бахъараб ритIухълъи тIоххол къайи гIадаб жойила. 50. ХIалицца гIияда нахъе битIараб гьойца гьумер хъахIаб жо гьабулареб. 51. ХIалихьатав чи бусен борлIун вилълъизегIан чIаго ххутIагийила. 52. ХIалихьатав гьудулассдасса яхI бугев тушманго лълъикIила. 53. ХIалицца базабураб какил кири букIунареб, хIалицца гьабизабураб хIалтIуда гугьар букIунареб. 54. ХIалтIарассда лъала ххинкIазул тIагIам. 55. ХIалтIи балагье, хIалихьалъи баччуге; хъантIун кванаге, дандеяссухъги валагье. 56. ХIалтIи батарассда боцIцIиги батулеб. 57. ХIалтIи битIун унаро, бутIрул лълъикIал гьечIони, гьобоги ххеноларо, жонода тIад гурони. 58. ХIалтIи бокьарасс гьобо бай, ургъел бокьарасс гIи хьихье. 59. ХIалтIи бокьизе лъабго сон къваригIунеб, кIкIухIал лIугьине лъабго къоги гIолеб. 60. ХIалтIи бокьуларесс кьалги хIехьолареб. 61. ХIалтIи буго ракIалълъ гьабулеб жо. 62. ХIалтIи гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб маххщел, дагьаб жо гьабизеги къваригIунеб гьелда рекъараб заман. 63. ХIалтIи гьечIев гIалимчи – цIцIад балареб накIкI. 64. ХIалтIи гьечIессе къо ххалатаб, рокьи ккарассе сордо ххалатаб. 65. ХIалтIи гьечIессул чед гьечIеб, чед гьечIони, гIумру гьечIеб. 66. ХIалтIи гьечIони, лълъикIлъи гьечIо, лълъикIлъи гьечIони, дунял гьечIо. 67. ХIалтIи, жаналда рекъон, гьабе, квен, чехьалда рекъон, кванай. 68. ХIалтIи катил гIадав, кванай хIамил гIадав. 69. ХIалтIи кутакалълъ гьабулареб, маххщелги къваригIунеб. 70. ХIалтIи къолеб, гIадамал бергьунел. 71. ХIалтIи лълъикIаб ххеххдаричIеб. 72. ХIалтIи лълъикIавги веццулев, хIелхIедаравги веццулев. 73. ХIалтIи – рухI гьечIеб жо. 74. ХIалтIи рихарассул гIусал-цабиги чIчIола (Кверал хIалтIичIони, цаби хIалтIуларо). 75. ХIалтIи тIагIаралълъ гIомо борлIулеб. 76. ХIалтIи тIагIун, чи холарев (Дир инссуцца нусиялда ххадур сонал ран рукIанила, гьессулни хIалтIи лIугIун букIинчIила). 77. ХIалтIи тIагIуна, гьабичIого тараб меххалълъ. 78. ХIалтIи тIагIуна, нилI хвараб меххалълъ; чи регIула, ункъабго къоно чIвараб меххалълъ. 79. ХIалтIи чIалгIарассул цаби чIандоларел. 80. ХIалтIани маххги гвангъулеб. 81. ХIалтIарассул габур биццатаб, хIалтIуларессул гьури биццатаб. 82. ХIалтIизе ккани – херав, хвезе ккани – бахIарав. 83. ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабе. Эменги васги рекьуда рукIанила. Вас ццеве вилълъунев вукIанила, инссуцца пурццигIоркь ккун букIанила. Васассда хIалтIи ххеххгого чIалгIанила. Гьесс оцал рахънисса къватIире ине толел рукIанила. Эмен гьессде семулев вукIанила. - Дида дур лIугIиго гьечIеб хIалтIи чIалгIана! – янги абун, вас лIутун унев вукIанила. - ЧIчIа! – ян ахIанила инссуцца. – ХIалтIичIого кваналеб бакI батани, нижедаги лъазабизе вачIа! 84. ХIалтIичIони, хIалтIи букIунаро. 85. ХIалтIичIони, чIамулареб, чIамичIогоги гIолареб. 86. ХIалтIуда маххссара лъалареб, маххссараялълъ квен кьолареб. 87. ХIалтIуда рекъарабила мухьги букIунеб. 88. ХIалтIудасса хIинкъуларессдасса хIалтIи хIинкъулебила. 89. ХIалтIуде унелълъул ццевехъан – мискинчи; берталълъе унелълъул ццевехъан – бечедав чи. 90. ХIалтIуе – квалквад, квание – гъалбацI. 91. ХIалтIуе – кечI, кинидае – лаилагьа. 92. ХIалтIуе – пахъла, квание – хъанхъра. 93. ХIалтIуде – хьадар, квание – гIедер. 94. ХIалтIул квешлъи – гьабунгутIи, гьудулассул квешлъи– хIалккунгутIи. 95. ХIалтIул лълъикIлъи лIугIидал лъала, чияссул лълъикIлъи хведал лъала. 96. ХIалтIул пайда гьечIеб, пикру гьечIони. 97. ХIалтIул рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 98. ХIалтIул ссвак хIалтIун гурони бахъулареб. 99. ХIалтIул ургъалида таги. 100. ХIалтIулев кванарав, хIалтIуларев хIацIцIадулев ххутIарав. 101. ХIалтIулел кверал гурел хъубал, хIалтIуларелин. 102. ХIалтIулел ратаралълъув хIалтIе, кваналел ратаралълъув кванай. 103. ХIалтIулIги кванилIги – ссундулIго гIорхъи букIине кколебила. 104. ХIалтIун бечелъарав гIорцIцIун хваравила, ххиялаз бечелъарав вакъун хваравила. 105. ХIалтIун бечелъула, бихьун цIцIодорлъула. 106. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIаб. Эбелги васалги хурир хIалтIулел рукIанила. Къалъуда эбелалълъ гьезда гьикъанила: - ГьабсагIат кьолеб ридигун ххинкIищ бокьилеб, бакъанида кьолеб хIаливайищ бокьилеб? - Бакъанида кьолеб хIаливаялдасса гьанжего кьолеб ридиги ххинкIги бокьила, эбел, – ан абунила цоясс. - Диени бакъанида кьолеб хIаливаго бокьила, – ян абунила цойгиясс. Бакъанида, хIалтIи лIугIун ххадуб, эбелалълъ кIиабилев васассда ццебеги гъобго ридиги ххинкIги лъунила. - ВахI, эбел, бакъанида хIалива кьезе гурищ къотIи букIараб? – ан абунила гьесс. - ХIалтIи лIугIун ххадуб кванараб ххинкI хIаливаялдасса гьуинаб букIуна, дир вас, хIал бихьея цо, – ян абунила эбелалълъ. - БитIараб букIун буго, эбел. ХIаливаялдасса гьуинаб ххинкIги буго, рахьалдасса тIагIамаб ридиги буго, – ян абунила васасс, гъираялда ццебе лъураб квенги кваналаго. ХIалтIун ххадуб квараб – гьуинаб, кьижун ххадуб квараб – кьогIабан кици рехханила эбелалълъ. 107. ХIалтIухъанассдасса хIалтIи хIинкъулеб, бахIарчияссдасса гула хIинкъулеб. 108. ХIалтIухъанассе мухь гьессда бараб гIетI бакъвалалде кьейила. 109. ХIалтIуцца хIалтIи малълъулеб, боцIцIуцца мацIцI малълъулеб. 110. ХIалхьи гьечIеб чIчIеялдасса чIчIей гьечIеб рилълъинго лълъикI. 111. ХIалценги, цIаги, рокьиги раххчун бажаруларелила. 112. ХIама бегьичIони, хIамихъ босараб бегьулеб. 113. ХIама бергьинегIан, чу биччалареб. 114. ХIама биларассулила къоги билулеб. 115. ХIама бугони, гъалдибер камиларо. 116. ХIама букIана – кьили щвечIо, кьили букIана – хIама щвечIо. 117. ХIама гIундуздассан лъалебила, гIабдал каламалдассан лъалевила. 118. ХIама кьололаго, кьолокьги чIвалеб, кьили бахъулаго, ххадубги чIвалеб. 119. ХIама кьололессеги хIал кьейила. 120. ХIама тункизабурассда гIорцIен тункизабулеб. 121. ХIама хвани, варис гьойила. 122. ХIама хвани, тIом ххутIула, на хвани, щибго ххутIуларо. 123. ХIама хвани, хур хола. 124. ХIама хвей – чодуе балагь. 125. ХIама – хIамихъего, чу – чохъего. 126. ХIама чIвай бацIил гIайиб батани, бацIал ругеб бакIалде ин хIамилги гIайиб буго. 127. ХIамабагьадур камураб росу букIунареб, хIажигIиса камураб бертин букIунареб. 128. ХIамабагьадурассул гIумру къокъаб. 129. ХIамабагьадурлъиги гьабуге, гьечIеб бахIарчилъи бихьизабизеги лIугьунге. 130. ХIамабахIарчилъи гьабизе ццевеги кIанцIуге, лIутизе нахъаги чIчIоге. 131. ХIамаги бацIадиссессул, бацIги бацIадиссессул. 132. ХIамаги дирго, гьирги дирго. 133. ХIамаги къваригIун, къадруги бокьун. 134. ХIамаги хIамайила, хIамида рекIаравги хIамайила. 135. ХIамагIанаб бацI букIунареб, бицанщинаб рагIи батулареб. 136. ХIамалъун гьагIулареб, гьойлъун хIапулареб. 137. ХIамида асскIобе гIари гуребила бачIунеб, гIорода асскIобе хIамайила. 138. ХIамида жибго хIама букIин, гIин цIцIараб меххалълъ гурони, лъачIебила. 139. ХIамида къвал бан, хIама балагьарав, чода рекIун, чу балагьарав. 140. ХIамида кьабизе щвечIони, гъалдибералдагIаги кьабейила. 141. ХIамида кьили рекъолареб, чода гъалдибер рекъолареб. 142. ХIамида кIерт берцинаб (Бищун берцинаб жоялда байилан хIамихъе цIцIумур кьурабила, гьелълъги жиндирго кIартида барабила). 143. ХIамида оххцер кваназе щибила лъалеб. 144. ХIамида рагIизе гъалдибералда кьабулеб. 145. ХIамида хIеренлъи лъалареб, лълъадуе рецц рекъолареб. 146. ХIамидаги мачу ретIарал, бачидаги чарухъал ретIарал. 147. ХIамидассанила бачида мал базе лъараб. 148. ХIамие жиндирго гьагIи берцинаб, хIелкие жиндирго гIегIеди берцинаб. 149. ХIамие тIил гьечIого гIолареб, тIоххое риди гьечIого гIолареб (ХIамие – тIил, тIоххое – риди). 150. ХIамие – хIенссеркIо, чодуе – цIцIал. 151. ХIамие – чури, чоде – кIалцIи. 152. ХIамикълъи бихьарассила хIамил къимат гьабулеб. 153. ХIамил гьагIдеялълъ гьойдул бетIер унтарабила. 154. ХIамил гIайиб – хIалакълъи, гIарцул гIайиб – гьечIолъи. 155. ХIамил гIундул ххалалъаралила, алжаналълъубе билълъунарого, цIцIан рачIчI къокълъарабила, къватIибе билълъунарого, тIун. 156. ХIамил инссухъачи гьвейила. 157. ХIамил мугъалда носол балги цун. 158. ХIамил рачIчIалда кигIан букIунебилан гьикъани, цоясс абила натI букIунилан, цогиясс абила натIгун бащадаб букIунилан. 159. ХIамил рачIчIалълъги чаргъеду ккурабила. 160. ХIамил сапаралълъ чи бечелъиларо. 161. ХIамил хвел – гьвел кIалбиччанкъо. 162. ХIамилги къажарассулги херлъи-бахIарлъи лъаларебила. 163. ХIамитIасса вортулев чотIа рекIунарев. 164. ХIамитIенкел тIад чIваниги, берцинай йиго берцинай. 165. ХIамихъего хьвагIулагойила бачил бохх бекараб. 166. ХIамицца абурабила, лъалареб бакIалдеги бачун, жиб чуйилан бичейилан. 167. ХIамицца ганчIилI речIчIулел, чоцца хIурулI речIчIулел. 168. ХIамицца гIундул кIорокIун, бацI хIинкъиларо. 169. ХIамицца жиндаго кьабизе тIил, къалиги бан, босарабила; гIабдалассда кьабизе тIил, къолода ххадуб ссахIги бан, босизе кколебила. 170. ХIамицца реххарав гIорцIада бегьуларев, гIорцIада чухьарлъарав чода ярагьунарев. 171. ХIан гIадин хIанчIиледухъ тамахгоги вукIунгейила, чIваркьан векиледухъ къвакIунги вукIунгейила. 172. ХIанчIарассда гурони, ххинкIил тIагIам лъалареб. 173. ХIанчIида ракIалда мочохурила. 174. ХIанчIидаги кIолебила жинда рекъараб лълъикIлъи гьабизе. Цо чияссул рукъзабахъ цIа ккун букIанила. Цояз гIертIаз, цояз хьагаз лълъимги баччун, цIа ссвинабизе лIугьанила гIадамал. ЦIа тIадеялдасса тIаде гьалаглъулеб букIанила. Кумекалълъе дагьалги гIадамал ругеланищан ккараб хIал букIанила. ГIадамазда чIчIечIого цIадуда тIаде боржун бачIунеб, нахъе унеб цо гьитIинаб хIинчIчI бихьанила. Цояз абунила гьаниб гьелълъул бусен батилилан, цогияз абунила тIинчI батилилан. Рукъалълъул бетIергьанассда бихьанила хIинчIчIалълъ, риччарал куркьбалги тварххезарун, цIадутIе лълъел къатIраби тIинкIизарулел. ГIажаиблъарав гьесс хIинчIчIалде ахIанила - - Я, пакъир! Гьалгощинал гIадамазда ссвинабизе кIоларого бугеб цIа дур куркьбаздассан тIинкIарал къатIрабазищ ссвинабилеб? - БитIараб буго, – ян абунила хIинчIчIалълъ. – Дир куркьбаздассан тIинкIараб лълъецца гьеб ссвинаро. Дие бокьун буго гIадамаз дуе гьабулеб кIудияб лълъикIлъиялда гьоркьоб цо гьитIинабниги бутIа дирги букIине! Гьединги абун, хIинчIчI нахъеги куркьбал риччизаризе анила. 175. ХIанчIчIие бусенги – ватIан, къоркъое хIорги – ватIан. 176. ХIанчIчIил багьа – чIарил хъат. 177. ХIанчIчIил кIалдисса мугьги бахъуге, чияда бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге. 178. Гьорол хIал хIанчIчIида лъалеб, лълъадал хIал ччугIида лъалеб. 179. ХIанчIчIилаб – хIанчIие, гъадилаб – гъадие. 180. ХIанчIчIицца абурабила - лълъикIав бахIарчиясс жинда гьецIцIоги речIчIиларила, къадарасс реххараб щвезе жибги чIчIеларила. 181. ХIанчIчIиццаги чIчIезе гIаркьел берцинаб бищулебила. 182. ХIапдолареб гьойдуе чури тIолареб. 183. ХIарам гьабурассе хIучч битIуларо. 184. ХIарам, хIалал кIоченчIого хIалтIулев Аллагьассеги вокьулев. 185. ХIарамаб боцIцIи кванан, кьаралъиялдаса, хIалалаб боцIцIи кванан, хIалакълъиго лълъикI. 186. ХIарамаб боцIцIуда баркат лъолареб. 187. ХIарччида нахъа чехь цIуне, чияр рокъоб бер цIуне. 188. ХIарччил кинаб рахъалдассан кваниги – цохIого мочол ххинкIал. 189. ХIарччиниб ххинкIги цо букIунаребила. 190. ХIарччиниссаги бортун, туртидассанги хъущтIун. 191. ХIарччихъ валагьун, кванай, копохъ валагьун, велъе. 192. ХIарщуда хIетIе хъвазе теларилан лIугьарав магIаруласс хIарщулI дегIен чIчIарабила. 193. ХIарщулI тIилал кьабуни, тIираби дудегоги щолел. 194. ХIарщулIе ккун чоргарав чурун вацIцIалъула, чагъир гьекъон чоргарав чурун вацIцIалъуларо. 195. ХIарщулIе реххунилан месед чуруклъулареб. 196. ХIарщулI цIцIалги кьабуге, цIцIалкIинибе лълъимги тIоге. 197. ХIасанил чу бачиде ккарабила. 198. ХIатIал ракулI ругессул кверал гьацIцIул цIолелила. 199. ХIатIида тункун ворчIиялдасса нуцIцIида тункун ворчIи лълъикIаб. 200. ХIатIиде бахине тани, нацIцI бетIералдеги бахунебила. 201. ХIатIикь щиб бугебали малъ гIодоб чIвалалде валагье. 202. ХIебтил бугониги, дирго кунта дарайдул. 203. ХIежалде анщинавги хIажи вукIунаревила, цIцIаланщинавги дибир вахъунаревила. 204. ХIежалде унилан, хIама хIажилъиларо. 205. ХIелеко гIегIедунилан сордо рогьинаро, гIегIедичIогойилан сордо рогьинчIогоги букIинаро. 206. ХIелеко лIугьунеб тIинчI ханинибго чIчIикIдулеб. 207. ХIелкида кколебила, жиб тIассан унелълъул, тIох тIечIого киндай ххутIулебилан. 208. ХIелкил гьудул гьечIевила, гьорол тушман гьечIевила. 209. ХIелкил гIадаб гIамал, гIебу гIадаб ракI. 210. ХIеренаб мацIцI чармил ххвалчадассаги бергьунебила. 211. ХIетIе кодобе босилалде, чIчIезе бакI хIадур гьабе. 212. ХIетIе хъущтIун вортарав тирщун тIаде вахъуна, мацIцI хъущтIун вортарассда вахъине хIал кIоларо. 213. ХIехьоларессе боцIцIи кьогеги, Аллагь! 214. ХIилаялълъ балагьуге, хIалтIун балагье. 215. ХIилаялълъ бергьинги гьунар буго. 216. ХIинкъараб гьой гIемер хIапдолебила. 217. ХIинкъараб лочнохъе чан щолареб, хIинкъараб боцца хъала бахъулареб. 218. ХIинкъарав гьойдаги ватIа гьавизе лъалевила. 219. ХIинкъарав къойил хола, къвакIарав цоцIцIул хола. 220. ХIинкъарав, къурав чиясс гIамал гIемер гьабула. 221. ХIинкъарав чияссда рохьги бойилан кколебила, гъотIол гIаркьелги жинде битIизабураб туманкIилан кколебила. 222. ХIинкъаравги гьардохъанги – гьвел мурад. 223. ХIинкъарассда мал балев, къвакIарассда къвал балев. 224. ХIинкъарассе хIалхьи гьечIеб. 225. ХIинкъарассул квер ххеххаб, виххарассул хIетI ххеххаб. 226. ХIинкъарассулгун гьудуллъи гьабуге. 227. ХIинкъарассухъа билараб багьадурассда батулеб. 228. ХIинкъи гьечIеб жо кетойила, кутак бугеб жо цIцIунцIцIрайила. 229. ХIинкъи гIанкIкIие те, хIамабагьадурлъи гIабдалассе те. 230. ХIинкъи – цIцIодорлъи, цIакълъи – гьаглъи. 231. ХIинкъизе бакI гьечIо чабхъад арав васассда, анцIила щуго сон бараб чуги буго, къого сон барав живгоги вуго. 232. ХIинкъиялдалъун чи къадаралдасса ворчIуларо. 233. ХIинкъуге, хIинкъараб жо толебани, катицца гIункIкI телаан. 234. ХIинкъуларев чи вукIунарев, биунареб чаран букIунареб. 235. ХIинкъуларев чи вукIунарев, хIехьезе кколеб. 236. ХIинкъун вукIин лълъикIав чияссги хIал дагьлъун букIин лълъикIаб чоццаги лъазе толареб. 237. ХIинкъун квараб гьанадасса хIинкъичIого квараб гьуэр лълъикIаб. 238. ХIинкъун къадаралдасса рорчIуларел, Аллагьасс гурони рухI бахъулареб. 239. ХIинццаб хIамаялда тIил рагIуларо, тIогьисса рачIчIги ккун, гьод буханиги. ТIадагьаб бетIералълъ малълъ босуларо, 240. тIолго гIалам бачIун, ццебе чIчIаниги. 241. ХIинчIчI бихьунила рорженги букIунеб. 242. ХIисаб бугин, бухIун кье. – ХIичи щиб? – ЧIчIикIу. –ЧIчIикIу щиб? – ХІичи. 243. ХIобода дарай ккуни, гьебги берцин бихьулеб. 244. ХIобое чIван, гIочIоцца чIалу кквеларо, чIалуе лъун, тIилицца тIох баччиларо. 245. ХIобоцца рукъ баччула, тIаде ккарасс къо хIехьола. 246. ХIор букIаралълъуб хIари камулареб. 247. ХIотоцца гьорчо кколареб. 248. ХIотол сум букIагIаги, мутIигIлъе бетIерассде. 249. ХIуби тиризабурассда цили тиризабулеб. 250. ХIуби чIвачIонани, чIалу бекула. 251. ХIуби чIвачIони, чIалу кколареб, чIчIужу гьечIони, рукъ кколареб. 252. ХIужа гьечIеб дагIбагун диваналде вахъунге. 253. ХIули – тIавусил, тIул-ракI – борхьил. 254. ХIунссизе хIамидаги кколеб. 255. ХIунчулеб заз баккудассаго лъалеб, лIугьунев чи гьитIинго лъалев. 256. ХIур тамахалъубила хIама гебергулеб. 257. ХIурмат бокьун батани, гIемер гаргадуге, сахлъи бокьун батани, гIемер кванаге.
- i | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
ЦI ` 1. ЦIа бакаралълъуве кIкIвелун, кIкIуй баккаралълъуве гьелун. 2. ЦIа босизе арай гьолокьей россассе арайила. 3. ЦIа гьечIеб кIкIуйги кIкIуй гьечIеб цIаги букIунареб. 4. ЦIа гьечIелълъуб кIкIуй букIунареб, лълъим гьечIелълъуб хьуцIцI букIунареб. 5. ЦIа рокъоб ккурай, бакъ рагъида ккурай. 6. ЦIа ссвараб цунтуралда кан бакизе кIоларо. 7. ЦIаги лълъимги асскIоб чIчIоларо, гьекъолдухъанассул чвантиниб гIарац чIчIоларо. 8. ЦIаги лълъимги гIадин рукIунге. 9. ЦIаго бакилалде, кIкIуй бахъарал. 10. ЦIагIел – дур, сакI – дир. 11. ЦIадаб бачIеб чед кунев Бигищ гIадин. Гъассда кIиябго рахъ кьеризабураб, жиги цIадаб бачIеб (тIаде цIа хъван бежизабичIеб) чедги корол хIамаялда базабун, цо гьитIинаб къваригIелалълъ къватIие ун йиго Бигищил чIчIужу. Гьагъаб параялда рокъове щварав Бигищ чед квине лIугьун вуго. - Вуйгь! Дуцца гьабулеб жо щиб, Бигищ, цIадаб бачIеб чед кунев! – ан чIчIужуялълъе кIудияб кеп щвараб меххалълъ, Бигищицца абун буго: - Рецц Аллагьассе буго! Унго, гьединищ иш букIараб! Валлагь-биллагь, дида ккун букIана дунго унтун ватилилан! 12. ЦIадабе бегьараб квер бухIичIого ххутIуларо. 13. ЦIадабе нарт тIолареб. 14. ЦIадул кутак лълъецца чIвалеб, загьрудал кутак даруялълъ чIвалеб, хIалхъублъиялълъул кутак ссунццаниги чIвалареб. 15. ЦIадулгун маххссара те, лълъадалгун божилъи те. 16. ЦIакъ ворххани, тIепула, тIепун чIчIани, ворххула. 17. ЦIакъ къвакIани, бекула, тамахлъани, гьетIула. 18. ЦIакъ лъала гIонкIкIода мугьал щолеб бакI. 19. ЦIакъ хIапулелълъ хIанчIулареб, ккун чIчIоларесс кьабулареб. 20. ЦIакъав чини вугоанила мун, дагьав гIантав гьечIевани. 21. ЦIакъалдасса цIакъаб жо камулареб. 22. ЦIакъго витIаравлъунги вукIунгейила, цIакъго гIакъилавлъунги вукIунгейила. 23. ЦIакъго гьаракь борххунги кIалъаге, кето гIадин, мимидизеги мимидуге 24. ЦIакъго гIакъилассул гьудулзаби дагьалила. 25. ЦIакъго гIемераб бечелъи бокьарав бугелдассаги ватIалъизе бегьула. 26. ЦIакъго рецц бокьулев ххадув беццлъизеги бегьулев, гIинкълъизеги бегьулев. 27. ЦIакъго рокьиялълъила катицца жиндирго тIанчIи кваналел. 28. ЦIакъго хIинкъарассда асскIореги къаларелила щайтIаби, ракI кьвагьун, гьев хвезе гурилан; цIакъав бахIарчияссда асскIореги къаларелила, жидеего зарал гьабиялда хIинкъун. 29. ЦIакъго чIухIарав чIвалев, унти баххчарав холев. 30. ЦIакъго эххеде ворххарав гIодов квеш речIчIулев. 31. ЦIаялде гIагараб гIарахъ бухIичIого ххутIулареб. 32. ЦIаялълъила цIа бакулеб. 33. ЦIел хIалтIи цIецца гурони гьабулареб. 34. ЦІеххезе чи щвечІони, хІохьода цІеххонги, цІеххечІого тогейила. 35. ЦIибаккараб босе, басралъун хвараб нахъе реххе. 36. ЦIиданделъарал росс-лълъади ругеб рокъобе илбис лIугьунаребила, базаралдеги бачун, бичилебилан хIинкъун. 37. ЦIида бацIцIунилан бацIицца бацIил гIамал толареб. 38. ЦIидалълъго раса-цIцIалкIу магIидайила. 39. ЦIиял башмакъазул къуцIи берцинаб, цIияй бахIаралълъул гIеретI гвангъараб. 40. ЦIияб жо лъималазда лъала, умумузда басриябги лълъикI лъала, цIиябги бихьула. 41. ЦIияб нух – цIияб рукъ. 42. ЦIияб ретIел ретIараб басрияб щайтIан. 43. ЦIиябги босе, басриялълъулги къимат гьабе. 44. ЦIиябищ, гьанже гьабурабищ? 45. ЦIиялълъ басрияб хисулеб, басиялълъ оц хисулеб. 46. ЦIубанагIан тIор гIодобе къулула, бечелъанагIан чи эххеде валагьула. 47. ЦIул бугони, гIащтIи камиларо. 48. ЦIулада бараххщун, цIа ссвине тарай, ЦIцIилцIцIида бараххщун, рукъ чорок тарай. 49. ЦIулада рекIараб цIа ссунеб, тIулида рекIараб цIа ссунареб. 50. ЦIулада цIа рекIани, бухIун лIугIула, ссуна, рекIеда рекIараб цIа кидаго ссунаро. 51. ЦIулакьодул гъотIода микьир бижуларо. 52. ЦIулалълъ рекъолареб канал ноцIцI гIадав, къадалI рекъолареб гьецIцIо гIадинав. 53. ЦIуна-къай гьечIезул къоял, чияда ццере квералги ккун, унелила. 54. ЦIуна-къай Ираналълъулгун даран-базаралдасса бергьунебила. 55. ЦIуна-къай къарумлъи гуро. 56. ЦIуна-къараб жоялълъе къо камулареб. 57. ЦIураб гIертIинибе лълъим тIолареб. 58. ЦIураб рагIинибе лълъимги тIоге, лълъеда накъищги бахъуге. 59. ЦIуралълъухъ цIураб кьолеб жойила гIорто. 60. ЦIураххинкIазулцин лълъикI гурила бо.
- xh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
М m M «Ма» бокьулев, «кье» рихарав. «Ма ссахI!» – ан бачIунеб гIака, «Кье ссахI!» – ан бачIунеб чу. «Ма» – ялда ццебе хIетIе лъоге. Мавул рокьи букIунеб, кьовул божи букIунеб. Магжида нус бабадулеб рекIинчIеб меххалълъ, кIалдиб мацIцI кIичIардулеб гьересси бицунеб меххалълъ. МагжилI иман букIунареб, рекIелI гурони. Магъал гьанахъ гьоэр щолареб (нилIее къваригIараб къоялълъ лълъикIалълъухъги квешаб щолареб). Магъил гIел тезеги Аллагьассул хIукмуйила. Магъил ургъел гьабулагойила хIанчIчIил боххдул тIеренлъарал. МагъилI ругел хурзабазги хабалI ругел умумузул рукьбузги гьабизе жо гьечIо – хIара хIажат буго. Магъихъ балагьун, кьурде, цер. Магь цIезе ссан гурел, ссахI цIезе хур гурел. Магъихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье. МагIарда бартуццаги лълъикIабаб кколебила. МагIарда гIи бугев – гIаг гьечIеб шарбал, ГIиялI куйдул ругев – тIох гьечIеб тIагъур. МагIарда чан букIаго, чурун хьаг цIеда лъоге. МагIардаги гIундул ругел, гIалххудаги берал ругел. МагIарде ваханиги, гьитIинав кIодолъуларевила, гвандиниве рехханиги, кIудияв гьитIинлъуларевила. МагIарде гъуниги, хIамицца заз гурони кунареб. МагIарде гIазу баги, гIухьби рокъой рачIине, ГIурдаде саву ккаги, вокьулессда бер чIвазе. МагIарде гIазу бани, гIурухъе цIцIорой кколеб. МагIарзухъа кIалдибегIан къокъаб жойила гьересси. «МагIарзухъан бачIаги!» - ян, чед кьун, воххизавуге дун; гьумер битIун кIалъараб кIалалълъ воххизаве дун. МагIарул киниялълъ гIадин магIарул чияссул черхх лълъадаруларо. МагIарул мацIцIалда кечI ахIулел, гIурус мацIцIалълъ гаргадулел магIарулал. МагIарулазул хур хвани, хьиндалазул пихъги холеб. МагIарулассул нахъагIакълу. МагIарухъ дибирлъи щоларев – лъарагIалде, лъарагIалда дибирлъи щоларев – Нугъаялде. МагIарухъе вачIани, дурго гьобол лъаларев, Чачаналде вачIани, дурго хIама лъаларев. МагIирокъоб гIоди рекъараб, берталълъ аваданлъи рекъараб. МагIицца квен босарай, кочIоцца рос восарай. МагIицца магIирукъ берцин гьабулеб. МагIу кIиго батIияб букIунебила: цояб чваххун бачIунеб, цояб бачIинабураб. МагIу-рагIиялълъул ххалалъиго щиб, ххарицел гуреб жо мокърукьги гьечIин? Гьуя-гьараялълъул гьарзалъиго щиб, хъандиро гуреб жо магIида гьечIин? НекIо кицилъун тIиритIарал гьал рагIабаз бичIчIизабулеб буго мискинчияссухъ гIоди гIададиссеб бугилан. МагIихъаналда рагIун букIун гьечIо: «БоцIцIи хIажат гьечIо, хIара къваригIун буго», – абураб битIараб кици. МагIу рекъезе – рагIи, кечI рекъезе – далалай. МагIу рекъезе – рагIи , риба хIалаллъизе – хIила. Буссурман диналда риба гьабизе (къарзалълъе гIарац нусел лъун, яги ххайир гIахьал гьабизелъун кьезе) бегьуларо. Гьеб рикIкIунаан хIарамаб жолъун. Гьеб хIарамлъиялдасса жалго рорчIизе, рибачагIаз гьадинаб хIила гьабулаан: Дицца дудасса духъе кьуралдасса тIокIаб кепек тIалаб гьабуле гьечIо, «ракI разилъунни», дуцца дие «чIобого» кье нилIедаго гьоркьоб разилъи ккараб къадар. Данде ккве гIонкIкIол кици: «Диего гIоло абулеб жо батани, дир чехь бихъаги, гьирдани тIад къвачIа рекъараб жо буго». МагIу-рорчIи хханассул гIадаб, хвел букъи Гергил гIадаб. МагIу хвалилI ахIе, кечI берталI ахIе. МагIуги кечIги, рекIеда бухIараб меххалълъ гурони, бачIунаро. Мадинатги Гагуги гIадин. Мадинатги Гагуги рукIаралила цIакъ цоцазе рокьарал кьерилал. Цоцаздасса ратIалъун, Мадинат ккарабила нилIер рахъалде. Гагу ххутIарабила рикIкIадаб улкаялда. Гьеб къоялдасса нахъе нилIер Мадинатги бугебила «Гагу! Гагу!» – ян ахIдолеб ххутIун. Гьеб биценалда данде ккун хъварал руго ЦIадасса ХIамзатил ххадур реххссарал рагIаби: «Дун гурхIулароан, гохI-гохIалда чIчIун, Гагу! – ян ахIдолеб Мадинатида. БукIун буго гъарим, гьанже дун гIадин, Дандеябги билун, балагьалда гъун». Мадугьал квешлъани – рукъ хисе, чIчIужу квешлъани – цIцIар тIаме, чу квешлъани – биче. Мадугьал лълъикIав гьоркьоб къед борххатав; гьудул лълъикIав рукъ рикIкIадав. Мадугьал лълъикIассул ражихо-хоно россассе арабила, мадугьал квешассул лълъикIай яс рокъой ххутIарайила. Мадугьалассда велъуге: бадибчIвай бихьизе гурин. Мадугьалассул гьобол хунилан, Гьолокье магIиде арай. Мадугьалассул хIалтIи малълъунги, ясал чIчIун тогейила. Мадугьалассул хIелеко хъазлъун бихьулебила. Мадугьалассул чед гьуинаб, чияр чIчIужу берцинай. Мадугьалассулгун гьоркьоблъи бокьарасс рагьда гьой хьихьулареб. МадугьалассулI кин вукIараван гьикъулебила къиямассеб къоялълъ Аллагьасс жиндирго лагъассда. Чи хун, гьессул хIисаб-суал гьабулеб меххалълъ, тIоццебе Аллагьасс жиндир лагъассда гьикъулебила мадугьалассулъ кин вукIараван. Динияб рахъги ххал гьабичIого, гIаданлъи-намусалълъул рахъ босаниги, мадугьалассулъ лълъикI вукIин – гьеб буго бахIарчияссулI букIине кколеб бацIцIадаб ххассият. Мадугьалзабазги беццани, цIцIилцIцIиеги росс щолевила (цIцIилицIцIги россассе унебила). Мадугьалихъ йигей палихъаналда щибго лъалареб, лъаларей рикIкIадегIан йигелда «кинабго лъалеб». Мадугьалихъги ватугеги кIкIухIалав чи, хобги асскIобе ккогеги хIалихьатав чияссда. Мазандаран дарай диеги щвечIо, жулпакатаналда дунги рекъечIо. Мазгьаб гьечев чи – чед гьечIеб таргьа. Майданалда баххчун, цер чанахъанасс толаро. Мазлумассе зулмуялълъул къоялдасса залимассе гIадлуялълъул къо захIмалъулеб. Макру-хIила гIемерасс цо тIабигIат кколаро. Макьидасса бергьараб жо гьечIебила. Макьие гурони, вегизе ккогеги. Макьие ссабру гьечIеб, рокьуе берцинлъи гьечIеб. Макьу гьуинал беразда сардил ххалалъи лъалареб. Макьу тарав тушман ххадув ккогеги. Макьу толеб жо – ургъел, гIадан холеб жо – ххиял. Макьу щварал кьижула, рокьи ккарал ссвердула. Мали Къвегъадаго, къвал мажгитухъго. Къвегъада буго ххунздерил хабалазда асскIоб бугеб хварал росулеб мали лъолеб бакI. Кици хIалтIизабула молода лъоларевги къвалицца вухьунаревги чи вукIунарин, чIухIдаруге абураб магIнаялда. Маланассрудинида гьикъарабила жаназадул молол ццебейищин лълъикI букIунеб, нахъайищилан. Ццебе-нахъаялълъул батIалъи гьечIин, тIад лълъикIаб букIунарилан абурабила гьесс. Маланассрудинил далай лIугIаниги, чIандахабаралълъе лIугIи гьечIебила. Маланассрудинидаги илбисалдаги гьоркьоб къотIи ккун букIарабила, цо-цо кечI ахIун бахъинегIан, цоцазул гъежда рекIине. Цин илбисалълъул гъежда рекIарав Маланассрудиницца ахIарабила лIугIиго гьечIеб «далай-далай». «ЛIугIуларищ? ЛIугIуларищ?» – ан зигардулебги букIун, илбисалълъ гьарарабила, жиб дур гъеждаги рекIинарин, кечIги ахIиларин, талихI кьегийин, гъоркье лIугьаян. МалахIосен ахIарав ахIе, ХIункърае кьурассе кье. Малълъ кIутIаниги, ботIрода унтулеб. Малълъаниги лъалареб, бетIер гьодораб бугони; малълъичIониги босулеб, бетIер цIцIодораб бугони. Малълъараб босизе чи тIагIун ххутIугегийила. Малълъараб босуларевги – ахIмакъ, босуларессда малълъаравги – гIабдал. Малълъараб гьабе, гьикъараб бице. Малълъараб гьабичIев ХIавал ГIалицца хIуличIого бана гIака магIида. Малълъараб гьабуни, дагIба кколаро, гьикъараб бицани, кьал букIунаро. Малълъараб гьабуни, мекъсса кколаро. Малълъараб гьудуласс – гьабураб дицца. Малълъарабги гьабичIо, гьикъун бихье жиндаго, гьикъарабги бицинчIо, гьеле живго чи ццеве. Малълъарабги лъаларей, лъарабги гьабуларей. Малълъарассул кIал бекулареб, кIанцIарассул бохх гурони. Малълъарассул малълъарабги гьабунила жиндир эбел хварайилан абурабила Маланассрудиницца. Малълъаризе цIакъав, гьабизе къадарав. Малълъарун чи лIугьунарев, буххун хIамил чу лIугьунареб. Малълъарухъаби гIемерлъани, гIадлу холеб. Малълъизе киназдаго лъалеб, гьабизе цояссда гурони лъалареб. Малълъизе чи камуларо, малълъараб босизе бетIер букIине ккола. «Малълъизе чи тIагIаги дур лъималазе!» - ян абурабила цоялълъ. «Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босугеги дуразго!» – ян абурабила дандеялълъ. Малълъизе чи тIагIагиян гьарарабила цоялълъ; малълъараб босизе чи нужерги тIагIагиян хьамурабила дандеялълъ. Малълъизе чи тIагIунаро, малълъараб босаги. МалълъичIеб гьабуге, гьикъичIеб бицунге. МалълъичIеб гьабурав, кьечIеб босарав. МалълъичIониги лъалеб, лъалесс гьабулелълъухъ ралагьани. МалълъичIониги лъалей, лъачIониги гьабулей. Малълъ босе гьитIинго, лъеберилI малълъизе ккарассдасса Аллагьасс цIунаги. Малълъа ццебеялдасса ххадуб. Малълъулел гIемерлъани, гIенеккулел дагьлъула. Малълъун гуребила лъалеб, бихьунила (Малълъун гурелила цIцIодорлъулел, бихьунила). Малълъун гуро чудкицца балкан кунеб, куцан гуро царацца къехь бищулеб. МалълъичIого цIцIаларав, цIцIаличIого дурусав. Малълъун чиги лIугьунарев, рахъдал мучариги лIугьунареб. Малълъухъе хьваде, хьихьухъе рукIа. Марагадал гурга габунибги бан, гаргаралълъул хъаба хъорщодаги лъун. Маргъалалълъул берцинлъи, кунада ххун, цIцIикIкIуна, къадруги дагьлъуларо, ххечIого тунин абун. Маргьабацца кантIула, магъалоялълъ кIвекIула. МаркIачIуде вачIунев кIичIудеги вачIунев, КIичIван тIагъур гIинда бан, богодеги вачIунев. МаслихIаталълъ рекъезарула, мацIцIицца ратIа гьарула. МатIу квешаб бугилан, гIайиб гьелде реххуге, МатIуялда гIайиб щиб, дур куц квешаб бугони. (МатIуялда гIайиб щиб, щайтIадул куц бугони). МатIуялда лъураб тIанкI ххеххго бихьулареб. МатIуялда лъураб цо тIанкIалълъ тIолабго матIу ссурукъ гьабула, цо кIкIухIалай гIаданалъ тIолабго гвай ссуризабула. Маххссара гажиялде ссверулеб, меххтел огьогьоялда лIугIулеб. Маххссара гьабе, бакI бихьун. Маххссара лъаларессе маххссара гьабулареб. Маххссара лълъикIаб, кIиго чи велъараб. Маххссараялълъе гIологи гьересси бищунгейила. Махх кьавуялълъ куна, гIадан ургъалицца куна. Маххул гел цIулал гелалде ккарабила, Маххул нуцIцIа цIулал нуцIцIаялде ккарабила. Маххщалицца нилIеда квен гьаруларо, жинццаго нилIее кьола. «Маххщел бугев» ХIасанил ГIали вукIаго, цоябги оц хъве! Маххщел гьечIев гьабигьан – агьлулъун гьечIев дибир. Маххщелги гьунарги – гьадингояб жо, гьудуллъи бугони, нухда ккола иш. Маххщелги гьунарги ххвалчацца къотIулареб. МахI квешалълъуб тIутI гIемераб. МахIаги гIагIаги гьечIони, мама букIунареб. МахIалда хIал букIаго, хIетI босе. МахIамалъун пер гурев, ГьатIиналъун цIцIан гурев. МахIцараб рекIелIан тIокIкIараб рагIи бачIунареб. МацIцI борхьилги лъан лълъикIаб. МацIцI гьой гуро, гьеб раххссида чIчIоларо. МацIцI гIадамассул кванаге, гIиял кванай. МацIцI кунаро, кваназе жо кье. МацIцI кIалдиб те, кIал богIое те. МацIцI лъаларев цIцIогьор хваги, цIцIар лъаларев тушман хваги. МацIцI лъалев – чода, чол бетIергьан – лъелго. МацIцI ххалатассул гIакълу къокъабила. МацIцIалда гьоцIцIо бугев, рекIелI загьру бугев. МацIцIалда нацIцI барав (МацIцI букарарав чи). МацIцIалда ракьа гьечIеб, гьелълъни ракьа бекулеб. МацIцIалда тIад – гьоцIцIо, мацIцIалда гъоркь – загьру. МацIцIалда хIал кIолаго, кIудиялде ваккуге, Каламалълъ реххулаго, ххвалчаде квер бегьуге. МацIцIалда цIцIам бугев – цIцIанда борохь барав. МацIцIалда чаран лъурай мунги, чарххида цаби ккурай дунги. МацIцIалде гьоцIцIо тIун, гьодилI жо балев. МацIцIид чи чIвала, цIцIогьод оц хъола. МацIцIил цIцIад барав, цIцIогьол гIор щварав. МацIцIихъанасс чияр рукъ, цIа гъвечIого, бухIулеб. МацIцIихъанассул кIал цIцIороги, цIцIогьорассул бер бахъаги. МацIцIихъанассул кIалалдасса цIунаги, цIцIогьорассул квердасса цIунаги. МацIцIицца чи чIвалев, боцIцIуцца вичун восулев. МацIцIххалат, гIакълукъокъ. МачIчIадалда хIанчIида бадиб тIатIи бихьарабила. Маялда мал бани, кьеялда къвал базе кколеб. Маян бихьизе кодобеги кьолебила дуниял, кьурун бахъун, кодоссаги унебила дуниял. Маян кьечIони, дунги хваги, кьураб босичIони, мунги хваги. Маян кьолеб гурони, кьеян гьарулеб къо бачIунгеги. Маян кьураб босичIони, кьеян гьаризе кколеб. Маян кьураб жоялде божи цIцIикIкIараб. Маян кьураб кьагIрил гьан Квине лъачIев хIалихьат, ЦIцIай эххеде, беххебе Хераб гIакдал тIеренчехь. Мегеж танщинав гIакъил гуревила. Мегеж ххалатассул гIакълу къокъабила. Цо цIцIалунчияссда гьедин хъван батарабила тIехьалда. Валлагьин, дир хIакъалълъулIги гьединаб пикру ккезе бегьулилан, зарукьги ккун, ххутIараб мегеж чIурхIулев вукIанила гьев. Магжида парххараб цIаялълъ гьессул михъалги чIурхIун рехханила. Цинги доб тIехьалда батараб абиялда гъоркь гьесс хъванила: «Валлагь, битIарабги букIун буго!» Мегеж хъахIлъанагIан гIакълу ботIролIе. Мегеж хIурул цIун букIаниги кIваричIила, чехь гIорцIцIун бугони. Мегежали дагIнидаги букIунеб, михъалали катидаги рукIунел. Мегежги михъалги гIолелани, Бегунги бихьинчи йикIинаан. Мегежни кIудияб бугоан, гIакълу гьитIинаб гьечIебани. Мегьед кьурай – каранда, керен кьурай – мугъалда. МегIер бичилалде, ххер биче, ххер бичилалде, хьацIцI биче (къадараб ццебе биче, лълъикIаб ххадуб биче). МегIер мегIералде кколаребила, гIадан гIадамассде кколевила. МегIералда нахъаги мегIер батизе бегьулебила. МегIералълъул рикъзи метер бачIунеб. МегIералълъ кквечIеб авлахъалълъ кколареб. МегIер кIкIванищ? ГIор кIкIванищ? (Яшав гьабизеги гIадамазулгун хIал рекъезабизеги гьедигIанассеб захIмат баччизе кколилан абураб магIна). МегIер мегIералде щун бугилан абуни, божа; гIадамасс ругьунаб гIамал тун бугилан абуни, божуге. МегIер радал беге, гIор къаденахъе беге. МегIер цIураб гIиялIа гIангис гIоркIкIен бищарав, хъутан цIурал цIцIаналIа цIцIодегIен балагьарав. МегIергун барщун, гIанкIкI тIубаларо. Мекъаб нух ккурассе битIараб нух бецIцIаб. Мекъаб цIул гIадав, цIулалълъ ноцIцI гIадав. Мекъалда асскIоссанила ритIухълъи унеб. Мекълъи – гIакълуялълъул загIиплъи. Мекъиял нухал гIемер рукIуна, битIараб цо гурони букIунаро. Мекъсса гьабуниги, цин-цин битIун кколеб, битIун гьабурабги цин-цин мекъсса кколеб. Мекъи кколарев гIакъил ватичIев, нух къосунарев ццевехъан ватичIев. Мелъел – лъолъол, лъеретI – гъогъол, гъедел – цIулал, цIцIилкьал – ролIул. Мергил зуни зобалазде рагIарай. Мерго меседилай, тIагъди гIарцулай. Месед балагьизе арав, гьеб бухъулаго, хваравила. Месед букIин гIоларо, меседил квералги рукIине ккола. Месед кьавуялълъ кунареб, гIарац гIонкIкIоцца унареб. Месед лъала биани, чи лъала боцIцIуда гьоркьов, чу лъала рилълъадалъун; квешай чIчIужугIаданалълъул макруялда ххадув щивниги гъоларо. Месед хъванилан, хъирмил багьа холареб. Меседалда асскIоб лъуни, маххги кенчIолебила. Меседалдасса меседил кверал лълъикIал. Меседалълъ ракъи кколаро, гIарацалълъ къеч хьваларо, нахърател богIол гьабе. Меседги какула, кодой щвечIони, Какизе бегьилищ, дуе щвечIони. Меседил бацIцIалъи бииндал лъала, чияссул вацIцIалъи вихьидал лъала. Меседил кверазул багьа гьечIеб, гьел ричун росизе щоларел. Меседил къимат къотIаралъубила букIунеб. Меседил къимат устарассда лъала. Меседил кьили чIваниги, хIама хIама буго, чу чу буго. Меседил лълъикIлъи – кьаву чIвангутIи, чияссул лълъикIлъи – гьересси бицунгутIи. Меседил хIал цIадабила лъалеб, чияссул хIал хIалтIулIила лъалеб. Меседил ца бугев, царал рачIчI бугев. Меседил цаби ругессе гIемер хьимхьидизе бокьулеб. Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас. Мадугьалассул вас вачIун вуго, метер лалде оц биччаларищан гьикъизе витIанин инссуццайилан. - Метер вачIа, хьул ххалатав инссул вас, - ан абун буго мадугьаласс. Метер лал тIамилалде, лалил бетIергьан хун вуго. Кициялълъ бицунеб буго инсанассул гIумру лахIзаталълъги божи бугеб жо гурилан. Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, метер цIцIалилилан дарсалги тоге. Метер гьабилилан хIалтIиги тоге, регIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге. Метер гьабулелде жакъа ургъе. Метер жужазе бугилан, жакъа рукъ лълъухьичIого тоге. Метер кколелълъул пикру гьабулессул бахIарчи вахъунаревила. Метер къоялълъул хIисаб гьабичIев нахъа пашманлъулев. Метер семиялдасса жакъа рагъи лълъикI. Метер щолел гьаналI пурщабаздасса жакъа щолел хъабхъилI пурщабиго лълъикI. Метералде тараб ссезеялде нахъбахъарабила, ссезеялде тараб гьоркьоб арабила. Метерго хвелел гIадин динги гьабейила, кидаго хвеларел гIадин дунялги гьабейила. Метерисселълъул пикру гьабуларессул жакъассебги букIунареб. Метерисса бохха, цер! (Билълъидалго бохха, цер!) ЦаратIинчI ун букIун буго къватIибе. Гьелда гIодоб батун буго цо нус. Гьеб берцин бихьараб царатIинчIалълъ нус кIкIун биччан тун буго. ЦIакъ боххун рокъобеги бачIун, жинда батараб носол хIакъалълъулI эбелалълъе бицун буго. - Кибхха гьеб бугеб? - Дицца гьеб къулчIчIана, эбел? - Метерисса бохха, цер! Метерисса царатIинчI, чохьол унтиги бахъун, хун буго. Мехх щварал къинлъила, къо щварал хвела. Меххтараб гIонкIкIоцца катида инссул цIцIар цIеххарабила. Меххтарав чияссе кьураб гIакълу – гIурулIе реххараб чIимихх. Меххтарассул дагIба-рагIи гIемераб, дандеяссул зарул пирххи гIедераб. Меххтарухъанассда яхI букIунареб, хIинкъарассда нич букIунареб. Меххтизабуни цIцIелжо бацIгун багъулебила. Меххтун велъила, вигьун гIодила. Микк чIаралълъуб микк бижула, чинари чIаралълъуб чинари бижула. Милат кIудияб букIунила, гьелълъул тарихх кIудияб бугони. Милаталда тIад вугев чияссул бетIер гьегьгIанаб букIине кколеб. Мимидулеб катихъе кидаго гIункIкI щолареб. Мина базе захIматаб, биххизе бигьаяб жойила. Мина босулелълъул, мадугьал цIеххе. Налъукьеги ккун, цоясс мина бичулеб букIун буго. Гьелълъул багьа чIчIезабун буго къого томен. Минаялълъул бетIергьан чIчIун вуго жинцца гьеб кIикъого томеналдасса гъоркье кьеларилан. Босулев чи чIун вуго къого томеналълъул багьаяб минаялълъухъги кIикъого томен абиялълъул магIна жинда бичIчIунарилан. Бичулесс гьессие жаваб кьун буго: къого томен рукъзабазухъги кколила, къого томен мадугьалассухъги кколилан. Босулев чIчIун вуго минаялда цадахъ мадугьалги вичулевлъи жинда рагIун букIинчIилан. Минаялълъул бетIергьанасс абун буго: рес букIарабани, азарго томен дуцца кьуниги, мадугьалассдассаги минаялдассаги жив ватIалъилароанилан. Ургъун вихьилилан, мина босулев нахъе ун вуго. Сапаралдасса вуссарав мадугьалассда бицун буго гьессул мадугьаласс рукъзал ричулел ругилан. АхIун рокъовегун, гьесс мадугьалассда гьикъун буго: кигIан налъийила дуда бугеб, щайила дуцца рукъзал ричулел ругел? Мадугьаласс, киссинисаги бахъун, гьессие къого томенги кьун буго, дагьабги хIажалъани, нахъеги вачIаянги абун буго. Цо заманалдассан дов чи вачIун вуго жиндир хIукму кканин, дуцца абураб багьаги кьун, рукъзал росизеян. Рукъзабазул бетIергьанасс гьессие мадугьалассулги жиндиргоги ккараб бицун буго. Дур мадугьалассул багьа къого томен букIун гьечIин, азарго букIун бугилан абунила гьесс рукъзабазул бетIергьанассда. Минуталълъ нахъа ххутIарав сагIаталълъ ххадув гъоларев. Мискинаб рукъалълъул мискинлъи баххчулеб жойила гIака. Мискинав вацассдасса бечедав ццинагIал вокьулевила. Мискинав вачIун, гьарун ина, залимав вачIун, бахъун ина (Мискинав вачIун, гьарун инебги лъаларо, залимав вачIун, бахъун инебги лъаларо). Мискинав ваццгIал – ццинагIал, бечедав ццинагIал - ваццгIал. Мискинав вукIа, бечедав вукIа, доре унелълъул – цого мусру. Мискинавилан росулI рагIизегIан, къарумавилан цIцIоралде рагIизе бокьилила. Мискинассде гьойги ххеххго бортулеб. МискинавгIан чи яхI-намус цIцIикIкIарав вукIуневила. Мискинассе заз гIадав, залимассе нах гIадав (ХIалимассе – хъиру, хъачΙассе – квасквас). Мискинассе къваригIиндалила гIор къунеб. Мискинассеги вакъарассеги бокьараб тIагъур данде кколебила. Мискинассул – гьари, бечедассул – хIал. Мискинлъаниги рагъулел росс-лълъади, бечелъаниги рагъулел. Мискинлъи баххчулев бечелъуларев, бечелъи ххирияв жо гIун холарев. Мискинлъи бугила балагь, гIагарлъи нахъе цIцIалеб, тушманлъи тIаде цIцIалеб. Мискинлъи лълъикIаб жо ани, бищун ццебе дибирасс жиндиего гьарилаан. Мискинлъи рогьо гуро, бечелъи гьунар гуро. Мискинлъиги ракъиги – яццгIалзабийила. МискинлъичIого гьудул лъаларевила. Мискинлъиялда велъулев, вежа-велъун вахъинчIев. Мискинлъиялдасса бакIаб гьир гьечIеб. Мискинлъиялълъе дару – хIалтIийила, хIинкъиялълъе дару – таваккалила. Мискинчи бечелъани, кIиго чIчIужу ячуней, Бечедав мискинлъани, цIцIогьодизе лIугьунев. Мискинчи вукъизе кьураб нусго гъурущалдасса чIаго вукIаго гьессие кьураб гъурущ бергьунебила. Мискинчи - живго мискинав, къарумассул – ракI мискинаб. Мискинлъи – росдал балагь, ссадакъа – ракъул балагь. Мискинчи тIадеялълъул бечедав. Мискинчи ххасало лъалев. Мискинчи ххиялаз бечелъулевила. Мискинчиясс бечелъи хIехьолареб, бечедав чиясс мискинлъи хIехьолареб. Мискинчиясс ссахIие гIоло мегIер бегулеб. Мискинчияссда велъуге, бечедассде хьул лъоге. Мискинчияссе дару – хвей. Мискинчияссул букIун буго, гьелълъул мугъалда хур бекьун, хъизан хьихьараб цо гьирил чу. Цин-цин, дагьабниги тIаде гьан бахинеян, гьесс гьеб гъолеб букIун буго магIарде. Чолни гьод цIцIоролалдего, гъарим мискинчи ине кколев вукIун вуго гьеб нахъе бачине. БетIергьанчи вихьараб меххалълъ, чу хIихIидулеб букIун буго. Ассги жаваб кьолеб букIун буго: «ХIи-хIи-хIи! - щиб букIинеб, дир гъарим, я мун хваги, я дун хваги! Гурони нилIее рахIат гьечIо!» Мискинчияссе квекIен гIемераб, бечедав чияссе кумек гIемераб. Мискинчияссе цIцIамуда ччураб ххинкIги гьуинаб, бечедав чияссе гьоцIцIоги цIцIекIаб, цIцIибилги кьогIаб. Мискинчияссул багьа – къого куй, нуцалчияссул багьа – нусго куй. Тариххаз гIемерал мисалаздалъун нилIеда бицуна ракьул бетIергьабаз кигIан цIакъ жидерго къимат гьабулеб букIараб, мискинчи кигIан къимат гьечIевлъун, гIодовегIанавлъун гьез рикIкIунев вукIаравали. Ракьул бетIергьабаз жидер балъазда, ххассал балъазда, рихьизарулел рукIун руго лагъассул, узденассул, нуцалчияссул батIи-батIиял къиматал. Гьел къиматал хIисабалде росулел рукIун руго чIвай-хъвей, лIукъа-къотIи ккараб меххалълъ рахъулел рецIелазеги. Мискинчияссул бечелъи – сахлъи. Мискинчияссул гьудул дагьав, рохь гьечIеб магIарда чан дагьаб. Мискинчияссул нуцIцIида нахъа жул букIунебила, рокъобе бачIараб бечелъи лълъухьун реххизе. Мискинчияссул рокъоб къецц гIемераб. Мискинчияссул рукъ – росу рагIалда, апарагассул хоб – хабалазул рагIалда. Мискинчияссул тушман гьечIев, лълъиегони вокьуларев. Мискинчияссул хур хханассул мегIералда бащадаб. Мискинчияссул хIорго ххутIарал гъудал. Мискинчиясс жиндирго хуриб бекьун букIун буго цIцIороссоролI. Гьава-бакъ рекъараб сон букIиналълъги, чIаран, хъуссун лълъикIго хъулухъ гьабидалги цIцIороссоролI цIакъ хIалигъун бижун бачIунеб букIанила. Мискинчиясс пикру гьабунила: исана дие хурисса лълъикIаб бачIин щвезехъин буго. ТIаде-гъоркье чагIиги рачIина, киназегони гIурал гъудал дир къавулI гьечIо. Валлагь, бачIин бакIарилалде, дун рохьове гъудал гьаризе ун лълъикI! Жиб-жиб къоялълъ хъулухъ гьабулеб букIараб хурги жибго тун, мискинчи, гIащтIиги бикIароги босун, рохьове къокъанила. КъотIанила цо лъорил гъветIги, гьарунила гIезегIанго гъудалги. Мискинчи тIад вуссиналде, рохьил болъоназ пасат гьабун батанила хур. Бахъун чIараб цо хIуби цIцIороссоролIулги тун гьечIоанила, бухъ-бухъун бан хурги хвезабун бугоанила… Гьеле гьедин хIорго ххутIун руго мискинчияссул гъудал. Мискинчияссул яс берцинай лIугьаги, вас лебалав лIугьаги. Михъида квер бахъулеб меххалълъ гьабичIеб жо магжида квер бахъулеб меххалълъ гьабун бажарулареб. МичIчI бекьаралълъуб – мичIчI, жух бекьаралълъуб – жух. МичIчIида мичIчI бижулеб, жухида жух бижулеб. МичIчIил кьолбода кьагIрил ххер бижуларо, кьурул нохъода гIарац-месед бижуларо. Могоро бан гуревила дибир реххулев. Дибирассда лъазабун буго метер бачазул иргаялде айилан. Дибирассул чIчIужу гIелгун къаццандизе лIугьун йиго, дибир бачазул иргаялде витIулеб гIадат гьечIилан. - Мун юцIцIун чIчIа! Могоро бан, дибир реххуларев, бачазул иргаялде аян лъазабураб гIола, - ян абун буго дибирасс. Могьое – гьали, гьанае – кватIи. Могьол хIурмат гьабурав вакъун ххутIуларев. Мокъ гьечIеб гIанкIу гIадин ххутIун вугила. Мокъ ккун босизе кини гурел, квер ккун бачине лъимер гурел. Мокъиде хъазги бахинабун, хIелкида къинлъеян абуге. Мокъокъ буго къвакъвалеб къасси бертин бугилан, микки буго гъулгъулеб цадахъ жибги бачеян. Мокъокъида чIор речIчIани, чIоролида зунтIулеб. Мокърукь бетIер тункичIого, гIакълу щолареб. Моххмоххалълъул нахалда чIоролодул нах бахунареб. Моххмоххги кIудияб, квасги ризаб куй букIунареб. Моххмоххиде хьулги лъун, хьолбодассаги ватIалъун. Моххмоххил маргьа бице, дада, моххмохх кварал гIадин рукIине. Моххрода хоно бухьунге, оцода данде баси баге. МоцIцI бугони, цIцIваби щай? МоцIцI канлъулеб рещалъидал, яс берцинлъулей балугълъидал. МоцIцI нилIехъан бугони, цIцIвабзазул хIал кколаро. МоцIцIиде гьабураб щвартIалдеги биххулеб. МоцIцIроде хIапдолеб гьой гIадин. МоцIцIрол гьумералдаги тIанкIал рукIунел. Мочол мугь гIанассел нилI рокьани, оцол бергIанниги нилIееги рокьулелила. Мугъ бекаяссул эбел, вас гьавулей йикIарай, оц гIорцIцIизе чIарги хун, чIвараб накуги унтун! Кицилъун лIугьарал ххалкъалълъул рагIаби руго хIалихьатав васассде абурал. Абун ратизеги бегьула гьессие гIоло наку чIварай эбелалълъ. Кициялълъ бицунеб буго некIого нилIеда кIочон тараб цоги жоялълъулги. РацIцIалъи букIиналълъул мурадалда, хIара чIварай чIчIужугIаданалда гъоркье реххулеб букIун буго бакъвараб чIарал квацIи. ЧIарахъан абураб рагIиги гьелдассан бачIараб букIине ккола. Мугъ биччичIони, хур биччулареб. Мугъ ссверунги чехь бугев. Мугъ ххалатаб чу гуро, чехь кIудияб оц гуро. Мугъ чIвазе бакI бугони, зарул пирххи букIуна. Мугъ чIвазе бегьулев гьудулассде щвараб жо щибго гьечIеб. Мугъалда квер бахъулев, чахьалда малал ралев. Мугъалълъ баччиялдасса чехьалълъ баччи лълъикIаб. Мугъзада чед букIаго, чехь бакъизе биччаге. Мугь бищун, бечелъуларевила, борч тIубан, мискинлъуларевила. Мугь гIемер гьализабе, гьан кватIизегIан гьагIдалI те (Могьое-гьали, гьанае – кватIи). Мугь-мугь ккун реххунила гIанххрил мигьирги гIолеб. Мугь цIубайдал, тIор къулулеб, пихъ бакIлъидал, гъветI къулулеб. Мугьалде мугь реххунила къали гIолеб. МугьгIаналълъул тIагъур гьабуге, тIутIгIаналълъул пил гьабуге. МугIрул гIариялдассаги цIунаги, гIи гьечIеб хъвехъариялдассаги цIунаги. МугIрул гIундул цIцIодорал, гIалххул берал цIцIодорал. МугIрул каву гIатIидаб, гIалххул берал цIцIодорал. МугIрул ракьандаги гIурул рагIалдаги чи вакъичIевила. МугIрул рохьаз берцин гьарула, рукъ лъималаз берцин гьабула. МугIрул рукъ – буртина, рукъалълъул хIуби – чIчIужу. МугIрул рукъги рукъалълъул хIубиги гьаруларебила. Цо гIандиссев буртабалълъе ун вукIанила. Цо лъалев-хъвалев буртисесс гьассда жиндирго гьобол цIехханила. Дагьал къояздассан жив ГIандиве вачIине вугин ва гьоболассда буртина гьаризе бугиланги бицанила. ГIандиссев рокъове щванила. Буртиссессул гьоболассда гьев буртиссев вачIинехъин вукIинги гьесс буртина гьаризехъин букIинги бицанила. Гьарани кьелеб батилаххаян гIандиссессги абунила. Цо анкьидассан буртиссев вачIанила ГIандиве. Цо кIудияб къваригIелго гьечIого вачIиналълъул, гьоболассда гьаризе цо жо букIиналълъул бицанила. ГIандиссесс, буртиссессул бицунеб жоги гьоркьоб къотIизабун, абунила: - ЛълъикI буго, гьобол, бокьараб жо гьаре, кьела. Цинги мугIрулги рукъги рукъалълъул хIубиги гьаризе бегьуларебхха. Хъассулаго гъванщагун, буртинаялде букIараб хьулги хIорлъун, буртиссев нахъ вуссун ун вуго. МугIрул хьон битIаги, хьиндал пихъ битIаги. Макъан – Гъуниб, кьурдулел – Ххунзахъ. МукIурлъиги – бахIарчилъи. Мун бечелъизегIан бечедги чIчIечIин, Бичилищ, эбелхвад, нухда гъоркьа хур? Мун, букIинчIеб рокъоб рекъечIеб кето, нухтIа битIун билълъа, батIергьанчихвад. Мун вахине гохI балагьулев дун – дун реххизе кIкIал балагьулев мун. Мун вихьила, дун йихьилаялълъул лълъикIаб жо кколаро. Мун вичIчIуларезде ургъел бикьулареб. Мун вокьулев чийилан рекIелI бугеб бицунге, дуцаго цIуничIеб жо чияцца цIунулареб. Мун вокьулессде рокьоялълъ гIагарлъе, вокьуларессдасса къол нухалълъ рикIкIалъе. Мун гъалбацI ватани, гIадамалги гIанкIкIал гурел. Мун гIадиналин гIадамалги рукIунел, дуе гIадинин гъозиеги бокьулеб. Мун, заманалда рекъон, хьваде, заман дуда рекъон хьвадулареб. – Мун кибе, гьитIинаб? – КIудияб балагьизе. Мун кида биххилебилан гьикъарабила къадада. ХIарщуда гьикъейилан жаваб кьурабила къадацца. «Мун кида хвелеб?» – ан гьикъарабила къохьода. «Нахуда гьикъе», - ян жаваб кьурабила къохьоцца. Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIунин, дурни устарги киданиги бахъинчIилан абурабила бацIицца гъотIоркIоялда. Рехъалълъа кьегIерги хъамун, тIурун унеб букIанила бацI. Цо гъотIокье щвейгун, гьелда чIинхъи чIванила. ГъотIода чи вугиланги ккун, гIодобе кьегIерги реххун, тIуранила бацI. Дагьаб добегIан щвейгун, лъалхъизеги лъалхъун, нахъбалагьанила. ГъотIода чи вукIун гьечIила, роххти борлIулеб гъотIоркIо букIун бугила. «Дуда чIчIегIераб къо чIчIад! – ан абунила бацIицца гьелда. – Мун кидаго, квартIа гIадин, кIетIолебги букIуна, дурни устарги киданиги бахъинчIо!». ГъотIоркIоялълъ данде гьадин къотIанила: «ЧIчIегIераб къоги, бацI, дудаго чIчIаги! ГIумру чахъаби рикъулаго аниги, дурги гIияхъан лIугьинчIо». Гьалда щай жиб кIалъарабан ракIалдеги ккун, бацIицца ххазабунила. – Мун кисса? – Жеги чIчIужу ячинчΙо. Мун къватIиссайилан дир къеццен гьечIо, РосулI къотIуларо къебедасс месед. Мун кьижун вукIунев, дур тушман кьижуларев. Мун кIодо гьавурав дуццаги кIодо гьаве, даим кIодолъи жиндиего къваригIарассда асскIовеги къаге. Мун кIочон тезегIан гIемерги кьогейила, Аллагь, дие боцIцIи, гIадамал гурхIизегIан дагьабги кьогейила. Мун лъелго вилълъине ккелароан, чода кIалдиб таргьа балебани. Мун лълъикIабилан абуни, хIамикIертги боххулеб. Мун лълъил гьакида рекIаниги, кечI гьессул бакъаналда ахIе. Мун мегIер ватаниги, цогидал мугIруздеги мугъчIвай гьабе. Мун хвела, дур лълъикIлъи кидаго хвеларо. Мун хIинкъизе кколаро – ккезе биччаге мунагь; гьеб чуризе кколаро – гьабуге ххияналъи. Мун цер ватани, дунги царал рачIчI ккола. Мун цIакъабилан абуни, хIамикIучIги кьурдулебила. Мун цIцIализе унелълъул, дун цIцIалун вачIунев вукIана. Мун чи ватани, чухъа ретIараб гIоларо, чорххолI гIадамассул тIабгIги букIине ккола. Мун чи ватилилан восун вукIана, ТIад пихъ бижулареб чинаридул гъветI. Чи мун вугилан ккун, восун вукIана, Чурун бацIцIунареб цIцIел квасул турут. Мунагь бугейила, буйзе ккани, кIудияб буйила. Мунагь камурав чи вукIунарев, гIайиб камураб квен букIунареб. Мунагьазул унтиялълъе дару – тавбу гьаби, чорххол унтиялълъе дару – кванил низам чIчIезаби. Мунагьго гьечIей яс ялагьулаго, чIчIужуго щвечIого, ххутIаравила. Мунги – ххан, дунги – ххан, хIама лълъицца гьекъелеб, хуриве щив инев? Мунилан холев дун, дун хабалалълъе восагиян мун. Мунго дудаго лъачIого, чияде рагIи абуге. Мунго дуццаго! Вехь вукIаравила хъощнив ххинкIал гьарулев. БачIарабила гьессда асскIобе цо щайтаналълъул тIинчI. Гьеб гогьаб тIанчIицца гьессул лъел цIураб парччи бегизабурабила, хьагинибе лахI бортизабурабила. Вехьасс кигIан лълъикIаб бицаниги, гьелълъ вехь цо хIалалда течIевила. Ццин бахъарав вехьасс щайтIаналълъул тIинчI, бан малгун, къватIибе реххарабила. ЧIичIидулаго гьеб лIутун унеб меххалълъ, ахIарабила вехьасс: «Дицца гуро мун, мунго дуццаго!» – ян ЧIичIидулаго жидер тIинчI бачIунеб бихьараб меххалълъ, щайтIабазул ахIи бахъарабила. «Лълъица мун? Щиб дуе?» – ян вехьассул хъош бугеб рахъалде рекерулел рукIаралила. ЩайтIаналълъул тIинчIалълъ жаваб гьабурабила: «Дунго диццаго, дунго диццаго!» - ян. Мунго дуццаго бугеб меххалълъ, щай ниж ахIуд рахъинаруралан, щайтIаби, тIинчIги буххулаго, нахъ руссаралила. Мунго дуццагоги веццуге, гьечIеб гьунаралдассаги чIухIуге. Мунго гьалаг гьавулеб гьаваялда рекIунге. Мунго тIассайилан мунги ватила, тIассатIохда рукIун, дудаго релъулел гIадамалги лъаларого. Мунищ наиб, дунищ наиб? Гьадин абула, гIагарав чияссул хIакимлъиялде мугъги чIван, жидерго хIакимлъи билълъинабизе бокьулел, кколарел ишал бетIералде росулел гIадамазул хIакъалълъулI. Аби бачIун буго Шамилил наиб Инквачилассдассан. Гьессул эбел лIугьуней йикIун йиго гIарзалълъ рачIаразул ишалда гъоркьое. Наибасс эбелалда абулел рукIун руго гьал рагIаби. Мурадалде щун, щивниги хвечIевила. Муса аварагасс Аллагьассда гьарарабила жинде гIадамал гаргадизе риччагейилан. Аллагьасс абурабила жиндего гаргадизе гьукъуларел гьел дуде гаргадизе кинин гьукъилелилан. Муса хурив вугониги, хурив Муса вугониги – цого жо. МутагIилзабазул цIцIалиялдасса цIцIогьол гьанал цIураб къвачIа бокьила. МутагIилзабиги рикIкIани, ясал гIемерал, гIухьбиги рикIкIани, гIантал гIемерал (хварал гIемерал). МутагIиллъун вас вугесс яс гьечIилан абуге. МутагIиллъун вугев васассдассаги россассе кьурай ясалдаги гьимун ца бихьуге. МухIума хвеялдасса ГIума хвейго лълъикIила. Мучариги чед гуро, чухъаги ретIел гуро. Мухь босиларилан аби – устарассулги гьересси, россассе инарилан чIчIей – ясалълъулги гьересси. Мухь гуреб жо кьун, вехь гурев чи тоге. Мухь щолареб хIалтIухъ баркалаги – мухь. Мухьни кьеларин, баркалагIаги щай кьолареб? МухIканлъи – шартI (МухIканлъи шартIилан, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх барабила). «МухIканлъи шартI» абураб кици тола, Мала Нассрудиницца хварай эбелалда махх баялда бухьинабун, релъа-роххун. Гьебни буго мухIканлъиялълъул хIакъалълъулI бугеб гIакъилаб кици. Хханасс пикру гьабулеб букIанила, жиндир вазирзабазда гьоркьосса кинавдай пуланаб вилаяталде хIакимлъун витIилаян. Гьесс хъулухъчагIазда буюранила, жиндир тIотIола гъадринибе тIун лълъимги лъе, къотIараб рахъги гъоркьеххун гьабун, гьенибе бащдаб гIечги реххеян. Цинги ахIанила цо вазир. Гьикъанила гьессда гьаб гъадриниб бугеб жо щибилан. Вазирасс жаваб кьунила гIеч бугилан. Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила цоги вазир. Гьессиеги кьунила гьагъабго суал. Гьессги жаваб кьунила лълъелIе реххараб гIеч бугохха, хханилан. Нух битIагиян гьессдаги абун, ахIанила лъабабилевги. Гьессиеги такрар гьабунила гьагъабго суал. - МухIканлъи – шартIан абун гьечIищхха, кIудияв ххан, – анги абун, лъабабилев вазирасс цо гьитIинаб гIучI балагьанила. Цинги, бегунисса реххун, битIунисса реххун гъадриниб бугеб жогун, хханассе кьучIаб жаваб кьунила: «Гьаб бугохха, ххан, лълъелIе реххараб бащдаб гIеч». Хханасс гьев вазир витIанила доб вилаяталде хIакимлъун.
- ss | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

- gh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Р r 1. Рагъ ккараб меххалълъ гуребила ярагъ хIадурулеб, рагъ ккелалдейила. 2. Рагъалдасса рекъел лълъикIаб. 3. Рагъалълъ вас гьавуларо, гьавурав чIван гурони. 4. Рагъалълъ къед баларо, бараб биххун гурони. 5. Рагъда щив бергьаравали, рагъ лIугIидал лъала, чIчIужуялълъ васищ гьавилевали, къинлъидал лъала. 6. Рагъде вахъиналде мунгоги лъай, дурго тушманассул къуватги лъай. 7. Рагъде лIутизе гурелила унел, рагъизейила. КIийидеги рекъав цо рагъухъан рагъде унев вукIанила. Данде ккарасс гьессда абунила, - Ле талихIкъад! ЛIутизе ккани, дуцца щиб гьабилеб? Бищун ццеве ххадув гъурасс чIван реххила гури мун! - Рагъде лIутизе гуро унел, рагъизеги бергьинеги уна! – ян жаваб кьунила рекъав рагъухъанасс. 8. Рагъидаго – бакъ, къотIнобго – мажгит. 9. Рагъулебги гIадат, рекъолебги гIадат. 10. Рагъун рихьунила белехь рекъарал. 11. Рагьуге ракI, рагьани, къаге. 12. РагьумахIугIан бегизе захIматаб мегIер гьечIеб. 13. РагIабаз гуребила калам берцин гьабулеб, магIнаялълъила. 14. РагIал бахъараб, ракьан бахъичIеб каламалдасса цIунаги. 15. РагIал бахъун, хур бекье, ракьан бахъун, бокь хъващтIе. 16. РагIал гьечIеб майдан букIунареб. 17. РагIалалдасса ракьан лълъикIаб. 18. РагIанщинаб бицаравги – гьерссихъан, бихьанщинаб бицаравги – мацIцIихъан. 19. РагIанщинаб бицинги мунагьила. 20. РагIанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб. 21. РагIарав нусго нугIассдасса бихьарав цо нугIго лълъикIавила. 22. РагIаралдасса бихьараб битIараб. 23. РагIи абилалде лъабцIцIул ботIрониб ссверизабейила. 24. РагIи бадибе лълъикIаб, тIил мугъалде лълъикIаб. 25. РагIи бакI бихьунила абизе кколеб. 26. РагIи баччуларесс зар баччулеб. 27. РагIи бице, бакI бихьун, ургъел бикье, чи вихьун. 28. РагIи бице, магIна бугеб, кици тIаме, гогьар бугеб. 29. РагIи бугеб рукъалдасса магIу бугеб рукъго лълъикIаб. 30. РагIи гьабизе – нус, нису кваназе – яс. 31. РагIи гьабуларесс боцIцIи хьихьуларо. 32. РагIи гьечIони, кечI букIунареб, гамачI гьечIони, къед букIунареб. 33. РагIи гьорое биччалев Гьорол МухIума. 34. РагIи гьуинаб бицун, гьоло кунев бетIеркъотI! 35. РагIи гьуинассул гьудул гIемерав, кIал хъачIассул тушман гIемерав. 36. РагIи гIакъил – гIакълугьечI, гьури кIодо – пишагьечI. 37. РагIи гIемерав вакъарав, бугIа гIемерав гIорцIцIарав. 38. РагIи гIемерав «гIакъил» гIадамазда чIалгIуна, чIалгIаде гаргадулев ххалкъалдаго рихуна. 39. РагIи жаниб лъоларессда бицинегIан, квенчIчIел цIун къватIибе байго лълъикIила балъголъиялълъе. 40. РагIи къокъаб лълъикIабила, гIарщ ххалатаб лълъикIабила. 41. РагIи къокъал, къадар ххалатал ратаги. 42. РагIи кьара буго – кьей хIалакъ буго. 43. РагIи кьварараб бице, кьабизе ккани, лIута. 44. РагIи кьогейила, кьуни тIубазабейила. 45. РагIи кьучIчIав чи чодаги лъалев. 46. РагIи лъалев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодов. 47. РагIи лъалев гIабдалассдасса мацIцI лъаларев цIцIодор лълъикIав. 48. РагIи рагIуде бачIуна, гIор кьодукье бачIуна. 49. РагIи – рекIел кIул. 50. РагIи тIагIуна, тIолалго гIадамал хвараб меххалълъ, гIайиб тIагIуна, щивниги тIад кIалъачIого тараб меххалълъ. 51. РагIи ургъун бице, гали борцун тIаме. 52. РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме. 53. РагIи ххалат, ххабар къокъ. 54. РагIи хвани, чи холев. 55. РагIи хварав чи – живго хварав чи. 56. РагIи холев чияссулгун гьудуллъиги гьабуге, холарев реххунги тоге. 57. РагIи-ххочI ххалатассул ххиянат камулареб. 58. РагIи ххалеб хадиро, ххараб цIцIалкIулеб цIцIалкIу (ххараб чIчIикIулеб чIукIна). 59. РагIи хIалакъаб бице, гьан кьарияб кванай. 60. РагIи – ццебессан, тIил – нахъассан. 61. РагIи цIцIалкIулеб цIцIалкIу, цIцIад кколареб буртина. 62. РагIи цIеххоге, хIалтIи цIеххе. 63. РагIи цIцIикIкIиналдасса чIагIа цIцIекIлъиго лълъикIила. 64. РагIи чол багьаяв – живго чахъдал багьаяв. 65. РагIи чIчIедал – гIакъил, кьалда бергьиндал – багьадур. 66. РагIиги кьун, тIубачIого теялдасса, рагIи кьечIого тезе бигьаябила. 67. РагIизе бокьулареб жо рагIулареб. 68. РагIиялълъ гIадан лъала, гIамал бихьун реххссола. 69. РагIуд гIорцIцIиги тIоход вакъиги – цого жо. 70. РагIуд ракъаги, богIод гIорцIцIаги. 71. РагIуда божуге, хIалтIуда божа. 72. РагIуда куркьбал рукIунел (ца таралълъ мегIер толеб). 73. РагIуда ххадуб рагIийила. 74. РагIуда хIатIал гъурай, хIалтIуде нуцIцIа къарай. 75. РагIудаги хIалтIудаги гьоркьоб къол нухила. 76. РагIуе рагIи камулареб, яргъие ярагъ камулареб. 77. РагIукъавщинав гIинкъав вукIунарев. 78. РагIул гугьар гьечIин, гьурал жалго те. 79. РагIул гIомо гьабуге, гIабдалгун щагъадуге. 80. РагIул гIомоялълъул гIарщал гьаруге. 81. РагIул камитал кварасс керен ххачазе ккараб. 82. РагIул квешлъи – ххалалъи, ххарбил квешлъи – гIемерлъи. 83. РагIул кумек боцIцIул кумекалдасса кIудияб. 84. РагIул магIна бичIчIуларесс битIараб гьерессилъун, гьересси битIараблъун гьабулебила. 85. РагIул магIна бичIчIулеб, бакI бихьун. 86. РагIулI лълъикIлъиги букIунебила, гIажалги батулебила. 87. РагIулIе загьру жубаге. 88. РагIухъ ралагьуге, хIалтIухъ ралагье. 89. РагIуцца бахъулареб хъала букIунаребила. 90. РагIуцца гIадан лъала, даруялълъ тоххтир лъала. 91. РагIуцца лIукъулел, рагIуцца сахги гьарулел. 92. РагIуцца рагIи бахъула, чIагIдацца гIуп бахъула. 93. РагIуцца хур беэн гьабуларо, гьури-мучалълъ чIараларо. 94. Радал багIар – къинаб, къасси багIар – хIораб. 95. Радал барщани, къасси рекъолел нилIералго лълъикIила. 96. Радал бицараб къоркъое арай, къасси бицараб борхьие арай. 97. Радал вахъаравги гьитIинго чIчIужу ячаравги нахъа воххулев. 98. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб. Журай къинлъулеб заманалда цо-цо ягъзинав вехьасс, радалго вахъун, жиндирго лемагалда чияр цIцIуяб кьегIер босизабулеб букIун буго, чияралда жиндирго бихьинаб кьегIер босизабулеб букIун буго. Гьединаб хъублъиялда тIад бижараб гьаб кици жакъа хIалтIизабула радал вахъарассул хIалтIи лIугьуна, иш битIун ккола абураб магIнаялда. 99. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб, ццудун вахъарассул сахлъи лълъикIаб. 100. Радал вахъинчIессе къо къваридаб. 101. Радал вахъудасса гIадин къаркъалаги букIунаребила, чи ховудасса гIадин ракIги букIунаребила. 102. Радал вачIарав гьобол ххеххго унев. (Гьаниб гьобол ккола тIабигIат. Умумузул аби буго радал рачIарал накIкIал ххеххго нахъе унилан). 103. Радал кваначIого, къватIивеги вахъунге, къватIул ххарбал росун, рокъовеги вачIунге. 104. Радал къалъизегIан бугони щиб къолол магъало, къалъудасса нахъе бугони щиб росдал кIодолъи. 105. Радал - къалъизегIан къулгъу цIцIалулев, къалъудасса нахъе чагъир гьекъолев. 106. Радал - къалъизегIан къуръан цIцIалулев, къалъудасса нахъе хIамул рикъулев. 107. Радал – къватIиве, къасси – жаниве. 108. Радал – рохьдолIе, къасси – бокьобе. 109. Радал роцIцIун, къалъуда кьерхун. 110. Радал яхъаралълъул балъ тIокIаб. 111. Радалги къассиги квен россассул бугони, къадеквенгIаги чIчIужуялълъулги букIине кколеб. 112. Радалго гьабураб хIалтIи лълъикIаб, гьитIинго ячарай чIчIужу лълъикIай. 113. Радалисса мацIцIицца чанги чи мукIурлъулев, мацIцIида ракI рекъарав бакъ ун ххадусса лъалев. 114. Радалквен дуццаго кванай, къадеквен гьалмагъгун цадахъ кванай, къассиквен тушманассе кье. 115. Ражи мискинчияссул дандежойила. 116. Ражи тIагIиндал тIураб цIцIамулIин гIадав. – Ражи хху - ххун, ххинкIал квин дуццаги те, Ххарабат! – ХхинкIазда гIужал райи дуцаги те, хIалихьат! 117. Ражи цIцIоролеб моцIцIалълъ ЦIцIолода рохьовеги унге, цIцIани къинлъулI мундерил ахакьеги унге. 118. РажидулI анкьго дару букIунеб. 119. Разилъи гьечIого яс ригьнаде кьейги кIудияб мунагьила. 120. Разияб къоялълъ гIурусазул гьатIанкъо гIадав, пашманаб къоялълъ жугьутIазул шаматкъо гIадав (ВитIани – гьатIан, гьетIани – шамат). 121. Рак бараб хуриве Аллагь валагьунев, бечедаб рокъое яс ялагьулей. 122. Рак баралълъуб хIалухъин хIалигIараб букIуна. 123. Рак гьечIого, бокь бичуге, бекьичIого хур бичуге. 124. Рак хIаллъанагIан, хIалухъин гьарзалъулеб, кици гIемерлъанагIан, калам берцинлъулеб. 125. Рак чIвачIеб хуралдассаги цIунагийила, хур гьечIеб рукъалдассаги цIунагийила. 126. Рак чIвачIони, ракьалълъ пайда кьолареб, хъулухъ гьабичIони, ахикь пихъ бижулареб. 127. Раква гьетIунилан, гьобо хисулареб, гьобо бекунилан, раква хисулареб. 128. РакугохI хисунилан хъабхъал чIахIалъиларо. 129. Ракъдадаги вукIун гуребила ччугIа кколеб. 130. Ракъдада лIугьараб хIор ххеххгого къунебила. 131. Ракъи – хьул, кIвахI – ссвак. 132. Ракъугеги, гIорцIцIугеги, рахакь хваги. ПатихIа. 133. Ракъуда нич гьечIеб, бечелъиялълъе гIей гьечIеб. 134. Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани, рагIи гьуинлъула. 135. Ракъул къали кIутIугеги, къохьол тIажу ретIунгеги, чиякълъун чи ххутIугеги. 136. Ракъусоналълъ месед учузаб. 137. Ракъусоналълъ руцIцIун чIчIарал, гIорцIцIунсоналълъ релъанхъарал магIарулал. Ракъусоналълъ, хъабиниб бетIерги къан, годекIаниссан унеб гьойда щивго велъичIевила. Хур бачIараб соналълъ, гьебги ракIалде щун, киналго релъаралила. 138. Ракъусоналълъ эбел якъуцца хварайила, вас, чохьодасса ун, хваравила. 139. Ракь бижилалде, рак бижарабила, гIолохъанчи вижилалде, гьекъолеб жо бижарабила. 140. Ракь бухъани, месед батулебила, рагIи бухъани, гIажал батулебила. ВукIун вуго цо бечедав чи. БукIун буго гьессул кIудияб ахги гIатIидаб пастIан-къоноги. Кидаго гьесс кIиявго васассда абулеб букIун буго - “РакьулI месед бугебхха, дир лъимал, рагIулI гIажал бугеб. Ворехха, нужецца ракь гIемер бухъе, рагIи дагьабги бухъуге!” – ян. Жинцца ракьулI баххчараб щибниги жо гьечIого, инссуцца кидаго нилIеда гьадал рагIаби гIемер абилароанилан ракIалдеги ккун, кIиявго ваццасс ракь гIемер бухъулеб букIун буго. Месед-гIарац жинда-жинда батилародаян, цоцаздасса балъгоги хъирщадулел рукIун руго. КъотIун буго пайдаяб жо батиялдасса хьул. Реххун тун буго ваццаз ракь, ракьалълъ гьалги тун руго. Заманалдассан гьитIинав ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги кIудияв ваццассул хIелеко хъазлъун бихьун буго. КIудияв ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги ккун буго гъозул хъаз варанийилан. КIудияссухъе щун батилин дагьабниги меседилан гьитIинав, гьитIинаб гIонкIкIоцца гуккун ватилин живилан кIудияв, цоцаздеги шакдарун, рагIи бухъизе лIугьун руго. Руччабазги риччан руго рагIул ххалатал раххссал. Инссуцца меседилан ссунде абулеб букIарабали бичIчIичIел лъималазда рагIулI гIажал цIакъго кIудияб батун буго. 141. Ракь кинаб букIаниги, гьелълъ гурони нилI хьихьуларел. 142. Ракьа гьечIеб гьан букIунареб. 143. Ракьа гьечIеб гьанги хIе гьечIеб гьоцIцIоги букIунареб. 144. Ракьалда бихьичIониги, хIарам зобалда бихьулеб. 145. Ракьалдасса бер гIорцIцIулареб, гIарац тIассан чваххулареб. 146. Ракь-ракьалълъул гIадат батIияб, гIадамазул ххассиятги батIияб. 147. Ракьа бугони, гьан камиларо. 148. Ракьа бугониги гIолебила ГIандисса чое. 149. Ракьалдассан рижарал нилI ракьалде тIад руссуна. 150. Ракьалда тIадалдасса ххиянатчияссе ракьул чохьонибго лълъикIила. 151. Ракьул бетIергьан вуго ракь хIалтIизабурав чи. 152. Ракьул гIанкIкI ракьул гьойцца гурони кколареб. 153. РакьулI баххчаниги балагьулебила гьунаралълъ къватIибе нух. 154. РакьулIе ккараб мугь тIирщичIого ххутIулареб. 155. РакьулIе регьел – ракьулIан тIорщел. 156. РакьулIе рехханиги, месед холареб, хабалIе аниги, бахIарчи холарев. 157. Ракьуцца кваназавизе бокьарасс ракьги кваназабе. 158. РакI бахIарлъунилан, черхх цIилъуларо, Чорххол лугбузул гьан гур-гурун ххадуб, Горбол щекI цIцIабуцIцIун, мугъ битIуларо, Мугъзал гьод къулараб къо бачIун ххадуб. 159. РакI бащалъуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, чехь бащалъуларессулгун гьалмагълъиги гьабуге. 160. РакI бакъвани – Закил рукъ, ццим бахъани – Ххизрил рукъ. 161. РакI бащалъун квараб гурга лълъикIабила, мекъсса руссун квараб чадидасса. 162. РакI беццлъиялдасса бер беццлъи лълъикIаб. 163. РакI бечедассул рукъ мискинаб. 164. РакI битIизегIан, мацIцI битIулареб. 165. РакI бихьуларев гьудулассдасса берал рихьулев тущман лълъикIав. 166. РакI гурхIун, асскIобе бачараб бурутI, ццим бахъун, бачахъизе ккарабила. 167. РакI гIедегIарассе нух ххалатаб. 168. РакI квегъиялдасса черхх квегъи бигьаябила. 169. РакI къварилъи – херлъиялълъул бащалъи. 170. РакI кьерхарассе дунялги кьерлъун букIунеб. 171. РакI рагьуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, сапар хIехьолареб хIамагун нухдаги унге. 172. РакI херлъичIогойилан, къаркъала херлъичIого букIунареб. 173. РакI унтун гIодани, беццаб бадиссаги магIу баккулеб. 174. РакI херлъугеги, хоб билугеги. 175. РакI чIчIараб жо – гIайлан чед. 176. РакI щваралълъубе хIетIги щун. 177. РакI щулияссул черххги щулияб, ракI тамахассул черххги тамахаб. 178. РакIал гIатIидалълъуб бакIги гIатIидаб. 179. РакIалда бугеб жо бицинчIогойила нухъа чIчIегIерлъараб. 180. РакIалда бугебщинаб гьурщизе кколареб. 181. РакIалда гьечIеб мугъалда нахъа батугеги. 182. РакIалда къараб къватIибе реххичIого ххутIулареб. 183. РакIалдасса ххеххаб жоги гьечIеб, ххеххго хисулеб жоги гьечIеб. 184. РакIалълъ борце, гIакълуялълъ къотIе. 185. РакIалълъ пикру гьабичIони, канал бераздаги щибниги бихьулареб. 186. РакIалълъ хвел гьарулей, кIалалълъ сахлъи гьарулей. 187. РакIа-рахари гьечIезул къо, къваригIараб жо балагьулаго, унебила. 188. Ралъад гъваридабгIаги, гьелълъулги тIину бугеб, мегIер борххатабгIаги, гьелълъулги бетIер бугеб. 189. Ралъад лълъецца гIорцIцIулареб, боцIцIи гIун, чи холарев. 190. Ралъдадаги гел лъе, гIемер бугилан исрап гьабуге. 191. Ралъдаеги щуб къваригIунеб, щубаеги бакъ къваригIунеб (Ралъдаеги – щуб, щубаеги – бакъ). 192. Ралъдал карачелалда рекIинчIони, гьоцIцIо щоларо. 193. Ралъдал лълъималълъеги пасалъи бегьуларебила. 194. Ралъдал лълъим цIцIикIкIуна тIаде рачIунел гIораздалъун, тIадчияссул лъай цIцIикIкIуна чияцца бицунелълъухъ гIинтIамиялдалъун. 195. Ралъдал тIину гьечIеб, гIорцIмадул тIинчI гьечIеб. 196. РалъдалIе бохх биччан паххрулъарай мун, Ралъад къундай бугеб, мун къулун йигин. Меседил мали чIван зодой яхарай, Молол гIучI бекундай, гIодой чIван йигин. 197. РалъдалIе лълъимги баччуге, рохьобе тIилги босуге. 198. РалъдалIе реххараб рукIкIада ххадувги унге, хварав чияссде гIайибги реххуге. 199. Рас бижанагIанила гIункIкI бугьунеб, бечелъанагIанила чи бараххщулев. 200. Рас ххалалъунилан хханасс мун ячинаро. 201. Рас хIеренаб бихьунила хIанчIицца руз бетIулеб. 202. РатIа – биххаро, бохх – гIуцIцIаро. 203. Рател гьечIеб хIалтIи – меххтулареб чIагIа. 204. РатIалги щоларого, щигатги гIоларого. 205. РатIаялълъ гьоркьоблъи тIезабулеб, боххалълъ гIуцIцIулеб. 206. РатIлид вуцIцIарассул хIурмат кIудияб, тIагъур хIуларассухъ гIин тIамулареб. 207. РатIлие эххетарав тIоххое бегьуларев. 208. РатIлил исбагьилъи – гьарзалъи, чорххол исбагьилъи - ххалалъи. 209. РатIлихъ балагьун – дандчIвай, ххарбихъ балагьун – тIовитIи. 210. РатIлицца чийилан, чухъа ретIарав, чоцца багьадуран, ябу рекIарав. 211. РатIлицца – чи, чоцца – багьадур. 212. Рахакь хIебтIарав хIал ккедал къватIив чIвалев. 213. Рахал рикIкIунев гьечIев чиясс квеш вугилан абуге. 214. Рахараб гъамассги буцIцIараб кIалги – кIиябго бечедаб жо. 215. Рахен гьечIеб гIор букIунареб, нух гьечIеб мегIер букIунареб. 216. Рахен гьечIеб кьуру гьечIеб, рагIал гьечIеб авлахъ гьечIеб. 217. РахъдалI бугониги, чиниги лъала, чурулI бугониги, меседги лъала. 218. Рахь баккулареб гIакдае чури кьоге. 219. Рахь гьечIеб гIакдацца гIартилI мал бала. 220. Рахь гIемер унеб бугилан, гIункIкI къан цIцIурай, гIадада жо теларилан, хвараб гIака бечIчIарай. 221. Рахь кьолареб гIакдае чури кьоге, пайда бахунареб жоялълъе ххарж гьабуге. 222. Рахь хахулелълъул бече хIалакъаб. 223. РахьдалI рас ххеххго бихьулеб. 224. Рахь-нах бокьарасс гIака лълъикI хьихье (ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран). 225. РахIат гьечIеб хIалтIудассаги цIунаги, хIалтIи гьечIеб рахIаталдассаги цIунаги. – РахIат, хIажи, рахIат! – ан абурабила гIарабиясс варани цогидазулалда ххадуб гъезабеян абурав хIеж борххулев магIарулассда. РахIат букIуна дие, дир вараниялълъул бетIер цогидазулалда бащалъараб меххалълъ! – ан жаваб кьурабила магIарулассги. РахIатаб гIумру бокьани, дуццаго чияеги гьабуге налъи, чияда дуегоги гьабуге. РахIатал гьарзалъани, гIакълу гьечIев чIухIула, Балагьал тIаде щвани, ххеххгого къварилъула. 226. РахIаталълъе гIей гьечIеб, рокьуе гIурхъи гьечIеб. 227. РахIаталълъе гIей гьечIебила, боцIцIи гIун, гIаданги хвечIевила. 228. РахIаталълъе гIей гьечIилан, ГIакулицца бусен борлIарабила. 229. РахIатгун – хIалихьалъи, захIматгун – бахIарчилъи. 230. РацIцIалъи гьабулей гурейила яцIцIадай, рацIцIалъи цIунулейила. 231. РацIцIалъи – сахлъиялълъул бетIер, чороклъи – унтул гьудул. 232. РацIцIа-ракъалъи гьабизеялдасса цIунизе лъазе ккола. 233. РацIцIа-ракъалъи гьабулелълъуб гуребила букIунеб, цIунулелълъубила. 234. Рачараз лълъудби хьихьаги, гьарураз лъимал хьихьаги. 235. Рачелалълъ чехь къарав, чоцца гьан къарав. 236. Рачиде баче чаран. 237. Рач-рачаги, а-аги, ирга дидеги щваги. 238. Раччлиде гIи аралълъуссан хIатIида гIицIцIго ине ккаги. 239. Раччи бачче черххалда рекъараб, квен кванай чехьалда рекъараб. 240. РаччулI хIама къинлъугеги, хIалтIулI лълъади къинлъугеги. 241. РачIчI бухьун, хIама чIчIолареб (ХIамил рачIчI бухьун чIчIолареб). 242. РачIчI къотIун, борохь къелIе биччаге. 243. РачIчI кIудияб лIугьинейилан, дегIен хьихьун букIарабила, лIурдул кIудиял лIугьун, чехь бихъизе ккарабила. 244. РачIчI ххалатаб гьойги хьихьуге, гьод ххалатаб чуги босуге. 245. РачIчIалдасса чIухIараб хIелеко гIадин. 246. РачIен гьечIеб рукъ – охх унеб гьобо. 247. Ращалъи гьабунагIан, гьуинлъи (гьудуллъи) цIцIикIкIунеб. 248. Ращалъиялълъул асслу – ритIухълъи. 249. Регьел гIуралълъубе щуб гIолеб. 250. Регьел хIалалъуб чед кIудияб, чи хIалалълъуб хIалтIи кIудияб. 251. Регьелги ххинлъиги гIедалила гIодобе бортараб мугь тIирщалеб. 252. РегIараб меххалълъ гуребила кумек гьабулеб, къваригIараб меххалълъила. 253. РегIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге, херлъараб меххалълъ гьабилилан динги тоге. 254. РегIараб меххалълъ гьабилилан кумекги тоге, щвараб меххалълъ бецIилилан налъиги тоге. 255. «РегIуларо», «щоларо» гIилалъун рикIкIунаро. 256. РегIун гIумру аги, хIехьезе гIакълу кьеги. 257. Рекъав чияссул рагIад къокъаб букIуна. 258. Рекъараб гIамал ккурав гIадамазе вокьула. 259. Рекъараб рехъалълъ хъумур речIчIулареб. 260. Рекъасс къвал цIурабила, къокъасс магь баччарабила. 261. Рекъел бугила масслихIатчагIазул иш, цин ХIаригабурлъи бегейила. Яс уней йиго васассда ххадуй лIутун. Гьезие хIинкъи буго ахIуд бахъун бачIараб ясалълъул гIагарлъиялълъ жал чIваялълъул. Ясалълъ васассда абулеб буго, унго, умумул нилIеда тIассагIаги лIугьинародай, гьел нилIгун рекъезарулев чиго вукIинародайилан. Васасс ясалда абун буго, цин хIинкъи бугеб бакIалдасса рорчIилин, маслихIаталълъе чи камиларев ватилилан. Кициялълъул магIна буго - «Цин хIинкъиялдасса цIуне, ххадуссеб ххадуб гьабе», – ян абураб. 262. РекъечIеб бицарассда бокьулареб рагIулеб, ххвалчадул ругънадасса рагIул ругъун унтулеб. 263. РекъечIелълъуб кIал гъурай, кIваричIелълъуб бер гъурай. 264. Рекъолареб ганчIицца къед ссурукъ гьабула. 265. Рекъон кванай, къецц бан хIалтIе. 266. Рекъон хIалтIаразул хIалтIи гIемераб, рекъон ахIаразул бакъан рекъараб. 267. Рекъон чIчIикIаре. Жибго гьитIинаб «гIамал кIудияб» кIиго рагIиялдассан гIуцIцIараб гьаб кициялълъул гьайбатлъиги берцинлъиги! Вихьизе гьитIинав, гьунар кIудияв чияссде магIарулаз абула тIаде вугевгIанассев ракьулIеги вугев чийилан. НилI жиндасса чIухIизе бегьулеб гьаб кIиго рагIиялълъул кьалбал гъваридал руго. Гьалълъ бицуна цолъиялълъулI гуч букIиналълъулги, росдал газа кьурда рекIиналълъулги, кIиго бетIерги рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ бечелъиялълъул, инсаният рекъон хIалтIанагIан, кинабго рахъ ццебетIеялълъулги, бищунго инсанассе хIажатаб, рекIее рахIат бугеб, хIинкъи гьечIеб гIумруялълъулги. Гьелда тIад бижана - «Рекъон хIалтIанагIан цадахъаб магIишат бечедаб», – ан абураб цIияб кициги. 268. РекIараб чуялда кьурдарав дун, кьолочIеб гIорцIмада рекIарав мун. 269. РекIаралълъув рещтIаги, борчаралълъуб бичаги. 270. РекIарассда лъелав велъуларев. 271. РекIаразул бода гьабизе кIолареб гIакъилассул кIалалда гьабизе кIолеб. 272. РекIарассухъ ралагьун, рекIа, рещтIарассухъ ралагьун, рещтIа. 273. РекIеда балареб гьуриялдасса гьури-бакъ чIвалареб чIчIегIер ракьулI лълъикI! 274. РекIеда бараб хIапаро гIадав чи. 275. РекIеда кIулал рарав, кIалдиб килас кьабурав. 276. РекIеда тIатIи рекIарав мун, тIулида нацIцI барав дун. 277. РекIеда тIатIи рекIарав хIариколоссессда хIатIикь цIа бакарав кIахъияв вичIчIиларо. 278. РекIедасса рекIеде – кьо. 279. РекIее бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколев. 280. РекIее бокьараб жо – чорххое мархIам. 281. РекIел бер балагьичIони, бералда канлъи бихьулареб. 282. РекIел бечелъиялда боцIцIул бечелъи бащалъуларебила. 283. РекIел гIадлу биххугеги, чорххол гIамал хисугеги. 284. РекIел гIин гIенеккичIони, гIиналда рагIи рагIулареб. 285. РекIел къварилъиялълъ гьакълиде цIцIалел, дагIба-къеццалълъ кьалде ахIулел. 286. РекIел пашманлъи хъамулеб гьури – хIалтIи. 287. РекIел хIуби – чехь, чохьол хIуби – чед. 288. РекIелI бугеб лъалареб, лъороб бугеб бихьулареб. 289. РекIелI бугеб меххалълъ нилI балъголъиялълъул хханзабийила, цабзаздасса борчIани, нилI гьелълъул лагъзалила. 290. РекIелI бугеб хъублъи гьурмадаги бихьулебила. 291. РекIелI цоги ккун, кIалалълъ батIияб бицунге. 292. РекIелI цIунараб цо хIарп лълъикIабила кагътида цIунараб нусго рагIиялдасса. 293. РекIелI чаран бугессе чинаридул тIилги тIассан ккараб ярагъила. 294. РекIелIа рокьи кIалдисса гIус гIадин бахъуларо. 295. РекIелIан бачIараб рагIи гурони, рекIелIе унареб. 296. РекIиндал Аллагь кIочон тарав, рещтIиндал чу кIочон тарав. 297. РекIиндал чу лъалеб, вилълъиндал рекъав лъалев. 298. РекIине лъараб гIадин, рекIараб чол квелълъ кквезеги лъа. 299. РекIинеги лъа, рещтIинеги лъа. 300. РекIинчIого чу лъалареб, чиякълъичIого чи лъаларев. 301. РекIун бихьун, чу босе, лъун бихьун, кьили босе. 302. РелъанагIан гIодизе кколел. 303. Релъедал макьилI щиб бихьулареб, вокьуларев чиясс щиб бицунареб? 304. Релъи букIунебила бачIарабги бачIине гьабурабги. 305. Релъи гIемералълъуб талихI гIемераб. 306. Релълъаразда релълъаралила росс-лълъади данде чIвалел. 307. Релълъаралда релълъарабила ратIлида рукъи балеб. 308. Релълъаралда релълъарабила рохьдолI хIайванги данделъулеб. 309. «Рес бугезул гъáлалълъ», – ан гьагай бикаялълъ месед гъалазда гьоркьоб хьухьун букIарабила. 310. Рес гьечIеб сон - савуд бухIараб дуниял. 311. Рес къотIидал вагъуларев чи вукIунарев, ручнибе тIамидал багъулареб гьой букIунареб. 312. Рес къотIидал хIинкъаравги къвакIулев. 313. Рес мекъаб гъветI камураб рохь букIунареб, гIабдал камураб росу букIунареб. 314. Рес рекъаравгIан чи – къарумав, мискинавгIан чи – саххаватав. 315. Рес щибила Чакарил, мочол хурий ятидал. 316. Ресги бугони, резги бугони, хъарбекIалда горал тIамизе бигьаяб жойила. 317. РетIел инжит гьабуни, ратIликълъиги бихьулеб, чед инжит гьабуни, чадикълъиги бихьулеб. 318. РетIел къадараб букIа абе, къамартIго чIчIа, мискинчи. 319. РетIел бихьун, къабул гьарулел, гIакълу бихьун, тIоритIулел. 320. РетIел бихьун – чи, чу бихьун – бахIарчи. 321. РетIел тIутIурассде гьабиги рортулел, тIагъур хIуларассда тIохIокги велъулев. 322. РетIел ххашав чияссде ххеххго рагIи реххуге, хъабчилI багьадур ватун, рекIекълизе бегьула. 323. РетIел цIидалъго цIуне, намус гьитIинго цIуне. 324. РетIел цIияб лълъикIаб, гьудул басрияв лълъикIав. 325. РетIине гурони къоги бачIинчIо, къойил ретIун хвараб дарайдул гурде! 326. РетIине камугеги, кваназе тIагIунгеги. 327. РетIине лъаларессе читери кьурав Аллагь, Чуризе лъаларессе мандари кьурав Аллагь. 328. Рехханщинаб чIор гIужда щолареб. 329. Реххаралълъуб тIенкел, тIамуралълъуб турут гIадин. 330. Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб бечелъи. Ххунздерил хханассулги гьидалъессулги бечелъи сабаблъун дагIба-къецц кканила. Жив бечедав вугилан ххан, гурила, жив бечедав вугилан гьидалIев чIчIанила. АхIанила хханасс гьидалIев Ххунзахъе, бихьанила гьессда жиндирго бугебщинаб гIарац-меседги гIарац-меседалълъул гьабураб къайиги. Жойидего гьабичIила гьидалIес гьеб бечелъи. Анила ххан ГьидалIе гьидалIессулги бечелъи бихьизе. ЦохIого цо цагъурги ссанкIалги цIураб ролI бугила гьессул, я гIарац гурила, я месед гурила. ГьидалIессул бечелъиялде бер-ракIго щвечIого, нахъ вуссанила ххунздерил хханги. Анила цо сон, анила кIиго сон, бачIанила Ххунзахъ тIалъиялдаго цIакъ хурукъаб сон. Хханасс, месед-гIарацги босун, гьакалги рачун, жиндирго гIадамал ритIанила ГьидалIе, ролI босизе. ГьидалIес, щибго жоги абичIого, хханассул месед-гIарац чури тIолеб росонибе банила, тIаде гьойги биччанила. Гьелълъ, чуриги чIчIикIун, месед-гIарац, цо мискъал камичIого, росол тIиналда ххутIанила. «Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб нужерго месед-гIарац нахъе босе», – ян абунила гьидалIесс. РачIарал гьакал цIун, ролIги битIанила ххунздерил хханассе. Гьанже бичIчIанила хханассда гьидалIесс живго щай бечедавлъун рикIкIуневали. 331. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила Мала Нассрудиницца, вараниялда куркьбал рижун ратичIелълъул. 332. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила хIамицца, чIчIужугIаданлъун бижун батичIелълъул. 333. Рецц бокьуларев ххан вукIунаревила, ххарж бокьуларев нукар вукIунаревила. 334. Рецц бокьуларев чи къанагIатав, ришват босуларев хIаким дагьав. 335. Рецц гьабун гаргадиялълъ бецц гьарула, гIунгутIаби рициналълъ кантIизарула. 336. Реццалълъ бецц гьавизе вукIунгейила. 337. Реццалълъ гуревила чи гьавулев. Иццухъ дандчIванила лъабго чIчIужугIадан. ТIоццеессей лIугьанила хIаталдасса ун жиндирго вас веццизе. “Дир гIадав малълъарабги гьабулев, гьикъарабги бицунев вас росулIго гьечIо. Лълъицца киве витIаниги, инкар гьабичIого, уна, щиб тIад къаниги, тIубазабула”, – ян абунила гьелълъ. КIиабилелълъги байбихьанила жиндирго вас веццизе. “Валагь, дирги вуго цIакъав вас. ЧIахIиязул адабги гьабула гьесс, гIиссиназул хъатирги гьабула. Цо лълъиениги кумек гьабизе щвани, тIокIаб щибниги къваригIунаро дир дарманассе. Щиб гьабизе дун лIугьаниги, ццеве-ццеве кIанцIун, гьабула”, – ян бицанила гьелълъги. Лъабабилей, гьезухъги гIенеккун, юцIцIун чIчIанила. Гьеб кинабго рагIанила цо херассда. Гьессда ракIалде кканила гьей лъабабилей гIаданалълъул лъимерго батиларилан. Батаниги, гьеб батилин кIкIвахIалаб, хIалтIи рихараб, эбел-инссул адаб гьечIеб рижи. Руччабаз гIертIалги хъубиги лълъел цIунила. Цинги, гъажалда гIертIалги ран, кодор хъубиги ккун, годекIан къотIун, унел рукIанила. Гьенив ганчIида гIодов чIчIун вукIарав цо гьитIинав вас дой щибго жо абичIей гIаданалда асскIове векерун анила. “Дихъе кье, баба”, – янги абун, гьелълъухъа хъаба босанила. Реццарулел рукIарал руччабазул добго ганчIида гIодор чIчIун рукIарал лъималин абуни тIадецин рахъинчIила. Гьеб кинабго бихьарав херасс, бетIерги кIибикIун, абунила - “Реццалълъ гIадан гьавуларо, гIамалалълъ гурони”. 338. РечIчIани, къелIе унев, къани, хIоболIе унев. 339. РечIчIулев-речIчIулев вукIа, цояб щвечIони, цогияб щолеб. 340. Рещалъараб меххалълъ моцIцI тIасса бекула, барщараб меххалълъ бетIичIеб пихъ бортула. 341. РещтIине лъаларев рекIинавуге. 342. РещтIине чIеп гуреб, чIчIезе мокъ гуреб, билълъая, бачинин мунго бичизе. 343. Ригь чIухIарав гуревила бечедав, хур чIухIаравила. 344. Ригьда рега, ригьда рахъа, рузил гIамал жибго те. 345. Ригьин гуро бацIилги гьойдулги гIадаб рекъел, гьудуллъи гуро царалги нухлулассулги гIадаб божилъи. 346. Ригьин – реццалълъул, даран – рекIкIалълъул. 347. Ригьин чияргун лълъикIаб, чи нилIерго лълъикIав (ригьин чияргун гьабе, чи нилIерго ккве). 348. Ригьинги ригьги ургъун гьабе. 349. Ригьнадасса воххарав кидаго берталълъ вуго, ригьин-цIа бигъаразе даимаб гIазаб буго. 350. Ригьнисса гьурал унеб, гьоросса гурцIал унеб (ххасел бащалъиялълъул гIаламатал). 351. Риди гьаризе унесс хъаба баххчулеб. 352. Риди дарулъи лъалебани, нахъияссе щвелароанила. 353. Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман. 354. Рии аги, бугIа гIезе, ххасел аги, рагIи гIезе. 355. Рии кьарияб, кьин хIалакъаб. 356. Рии кьижун арассе ихдал мискинлъиялълъ макьу толареб. 357. Рии нахулаб бачIаги, ххасел бечедаб бачIаги. 358. Рии чIчIедал, хур бекьарав, ххасел чIчIедал, ххер бецарав. 359. Риида – тIингъилI, ххасало – чухъилI. 360. Риидал бакънал рачуней йикIарай ххасало кьурдулей йикIа. 361. Риидал бакъуд мугъ бухIичIони, ххасало чIагIдад чехь бухIуларо. 362. Риидал борохь бихьарав ххасало гIарщикьа хIинкъулевила. 363. Риидал гьарурал ганчIал кьеян абулебила ххасало гIачияз. 364. Риидал гьекичIони, ххасало гьунщуларел. 365. Риидал гIадалнах гьаличIони, ххасало хьаг гьалуларо. 366. Риидал гIодобе бегьараб квер чIобого бачIунареб. 367. Риидал гьабичIеб ххасало батулареб. 368. Риидал жиндие гIоло чIваян абулебила чоцца тIукъби, ххасало нужеего гIоло чIвайила. 369. Риидал кьижани, кьиндал гIака холеб. 370. Риидал кьижарай Кьара ГIашура, Кьиндал гIака холеб рагIичIищ дуда? 371. Риидал риди гьекъе, ххасало нах кванай. 372. Риидал тIимугъ босе, ххасало буртина босе. 373. Риидал – Ххалунчакар, ххасало – Гвангвачакар. 374. Риидал херабги босуге, ххасало хIалакъабги босуге. 375. Риидал хур бекье, ххасало кор баке. 376. Риидал хурив хва, ххасало рокъов хва. 377. Риидал хIалтIарав кьиндал кванала. 378. Риидал черхх берцин гьабула узданаб ретIелалълъ, ххасало – ххинаб ретIелалълъ. 379. Риидал чIарадичIони, ххасало гьороб жо букIунареб. 380. Риидала – Ххассбика, ххасало – къватIулбика. 381. Риидалил цого хур, ххасало гIазукь къараб, Ххасалил цого ссугъур, боххиссан ххер баккараб. 382. Рии-риидал – чIор-чIорол, ххаса-ххасало – гуд-гудучI. 383. Рикьи балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе къали чIехьолареб). 384. Рикьул гьарурал ххинкIал ригьда кунев алазан. 385. РикIкIада бугеб гIагарлъиялдасса асскIов вугев мадугьалго лълъикIила. 386. РикIкIада месед бугилан рагIани, асскIоре щвейдал пахь батулеб. 387. РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула, хун рагIилалде, рукъун ратула. 388. РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардасса квараб ссахI лълъикIаб. 389. РикIкIадассан йихьизе лълъикIай чияр яс асскIоре щун йихьизе жо гурей жо ятула. НекIо гIемериссел магIарул росабалI гIадат букIана абурай яс жиндирго абурассда йихьизе чIчIолареб. Тоххлъукье данде чIван, вас кIалъаниги, яс кIалъалароан. Чанги ячунаан бер чIван йихьичIейги. Гьелълъул хIассилалда гьадаб кициялълъ бицунеб жоги гIемер кколаан. РикIкIадассан гурони чияда рихьуларел бечедал чагIазул жанир тун цIунарал цо-цо ясал канлъукъал, рагIукъал ратулаан. 390. РикIкIаде боржараб гIумру къокъаб цIцIум. 391. РитIухълъи ххвалчадассаги рекIараб. 392. РитIухълъи цIунизелъун рухIалдаги бараххщуге. 393. РитIаралщинал рагIаби берцинал рукIунарел, берциналщинал рагIаби гьерессиялги рукIунарел. 394. РитIухълъи гъоркье, тIекълъи тIаде ккараб заманги букIунебила (Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман). 395. РитIухълъиялде нух ххалатаб. 396. РитIухълъиялълъе диван хIажалъуларо. 397. РитIухълъиялълъул нух гIатIидаб. 398. Рихараб ххоххоцца ххер гIемер кваналеб. 399. Рихханжоялълъул жо гIолареб, гургил чед лIугьунареб. 400. «Рихьдае Бичассул чагIилъун хIараз, Сунатабги гьабун, гьоркьоб тола парз». 401. Риццатазе – тIорахь, тIереназе – риди. 402. РицIцIил тIилада тIорччол бер гъурав вугониги, чоххтIо-чIинчIуялдаса къадараб тIагъур букIунареб. 403. Ришват босуларев хIаким дагьав, хIарам гьабуларев даранчи дагьав. 404. Рододасса нах буххарав, хвараб хIамидасса тIукъби рахъарав. 405. Рокъоб бугеб – къватIул лълъим, кватIиб бугеб – гьацIцIул лълъим. 406. Рокъоб гамачI къулчIчIизе кканиги, къватIиб лъазе тогейила. 407. Рокъоб гьой – къватIибги гьой, рокъоб бацI – къватIибги бацI. 408. Рокъоб как баларев Гогол ГIалицца, гамаялде вахун, жамагIат бана. Кицилъун лIугьарал гьал рагIабаз бицунеб буго ххалкъалда гьоркьор рукIарал жидеццаго какцин баларел, жамагIаталълъе динияб ццебехъанлъи гьабулел рукIарал гIадамазул. 409. Рокъоб къадру гьечIессул къватIибги букIунареб. 410. Рокъоб къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб. 411. Рокъоб къир-къир бугони, дуниял къварилъула. 412. Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIасселълъ. 413. Рокъоб ххам бугони, ххалатаб гурде, ххараб жо бугони, чIахIиял ххинкIал. 414. Рокъоб чед бугессда чияр мацIцI лъаларо. 415. Рокъобго къулгIаги тун, къватIисса лълъим баччарай. 416. Рокъобе нух кидаго гIагараб. 417. Рокъов вукIун, хур босулеб, хурив вукIун, рукъ босулареб (хIажатаб ццебе босе, цогидаб ххадуб босе). 418. Рокъов гъалбацI – къватIив гIанкIкI. 419. Рокъов – дегIен, къватIив - цIцIе. 420. Рокъов цIцIогьор хваги, ЦIцIоров дибир хваги. 421. Рокъой йигеб меххалълъ инссул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ. Кициялълъ бицунеб буго, россассе кьурай яс тIад юссун ячIараб меххалълъ, гьелълъул къадру холилан, хъизаналълъе гьей йокьуларилан. 422. Рокъой йигей лълъадул «лълъикIлъи» батила, лълъимцин хъван гьечIо дур шарбалалда. 423. Рокъой лълъади йокьун, къватIий дун йокьун, Къвалакь гьудул йокьун, берал дий къвакун. 424. Рокъой чIчIужу – бакъги моцIцIги. 425. Рокьаразул такъсир – гьитIинаб мунагь, рихаразул ххатIа – кIудияб мунагь. 426. Рокьи басандичIони, хIалтIул хIур бахъунареб. 427. Рокьи бергьараб жо ккола, эбел-эменни рази гьариги инсанассул борч ккола. 428. Рокьи бикъарав цIцIогьор кколаро. 429. Рокьи бищунго ццидалаб цидулги кколебила. 430. Рокьи гьабизеги вас къваригIунев, Ярагъги борчарав, чуги рекIарав. Балай гьабизеги яс къваригIуней, ГIалххул чундузда гъорлI ритIучI гIадинай. 431. Рокьи гьечIеб черхх – чед гьечIеб таргьа. 432. Рокьи гьечIеб рекIелI ццин букIунаро. 433. Рокьи ккани, кочIохъан яхъуна, чехь бухIани, магIихъан яхъуна. 434. Рокьи ккаразе бусен носол балалдаги гIолебила. 435. Рокьи ккаразе нохъоги – кIалгIа. 436. Рокьи ккарай яс кьералълъ бицуна. 437. Рокьи ккечIей гIаданалда, росода нахъа чIчIун, квен гьабизе лъаларебила. 438. Рокьи ккечIого гьабураб ригьин – гьодораб. 439. Рокьи кьерилI букIунеб. 440. Рокьи, кьолбода гьикъун, гьабулареб, кьал, годекIаниб гьурщун, гьабулареб. 441. Рокьи лълъилго кколеб – рокьуе къвал къазе чи къваригIунев. Балай лълъилго бергьунеб – балай хIехьезеги вас къваригIунев. 442. Рокьи хIарамаб гьечIо, цохIоялълъухъ бугони. Гьекъел хIарамаб гьечIо, гьекъезе лъан, гьекъани. 443. Рокьи – цо, рещтIунеб бакI – кIиго. 444. Рокьиялда гьоркьоб кьалги букIунеб, Балаялда гьоркьоб кьогIлъиги кколеб. 445. Рокьое баге, гьанае бай. Кициялълъул магIна буго хIайваналълъе рагIи-ххер, гьелда гьан букIаго, кьара букIаго, бай, рокьоде ккун ххадуб хIайван кьара гьабизе захIмалъулилан абураб. 446. Рокьуе берцинлъи къваригIунареб, макьие къаданижо къваригIунареб. 446. Рокьуе малълъарухъан хIажалъуларевила. 447. Рокьул рачел къазе чи къваригIуна, Балагьи хIехьезе яхI къваригIуна. 448. Рокьул ццебехъан – маххссара, кьалул ццебехъан – квекIен, кьерхадул ццебехъан – гьури. 449. Рокьуцца ракьа биунеб, балаялълъ берзул нур унеб. 450. РолI бекьарас ролI лъилъулеб, муч бекьарасс муч лъилъулеб. 451. РолIуда гъорлI сусур гIадин вукIунгейила. 452. РолIул хурир ганщалги тун, ссанда ругел бачазе гIадлу гьабулел. 453. Роол къо ххасалил анкьида бащалъулебила. 454. Роол рукъ – буртина, рукъалълъул хΙуби – лълъади. 455. Роржунел жалазда гъорлI чIчIегIераб лачен гIадав. 456. Росс вокьуларей чIчIужуялда гирун бачIунеб гьорчоги гьессул гIайибалдалъун бачIунеб бугилан кколебила. 457. Росс гьавулейги – чIчIужу, росс чIвалейги – чIчIужу. 458. Росс гьечIей чIчIужу – къед биххараб рукъ. 459. Росс какулаго, рукъ кварай, гIака какулаго, нах кварай. 460. Росс квешлъани, лълъадуцца чияхъ рокьи гьабула. 461. Росс кIодо гьавулейги – чIчIужу, чIахIилIе реххулейги – чIчIужу. 462. Росс лълъикIай чIчIужу – лълъикIай, руссун лълъикIаб чу – лълъикIаб. 463. Росс реххулеб кIкIалги – лълъади, росс вахунеб щобги – лълъади. 464. Росс рихаралълъ абулебила жинда росс щакдарулилан, цIцIали рихарасс абулебила жив дибирассе вокьуларилан. 465. Росс хер гьавулейги – чIчIужу, бахIар гьавулейги – чIчIужу. ДахIаххенеро гIадин, гьабил рогIороялълъул бетIералда ххенолеб букIанила цо багIаргIеч. ХIалалав гьабигьан, гьелълъул бетIергьанчи цIеххезе, гьабирахъ чIван эххеде анила. Бищун ццебе батараб ахил бетIергьан – хъахIаб мегежалълъул херав чиясс абунила гIеч жиндир гурин, тIадеххун вугев кIудияв ваццассул батизе бегьулилан. ВитIулаго-витIулаго, гьабигьан тIаде кканила чIчIегIераб михъ-мегежалълъул гIолохъанчи – бищун кIудияв ваццассде. ГIечги гьессул ахикьа бортараб батанила. Гьабигьанасс цIакъ тамаша гьабулеб букIанила ваццазул гIумруялда. КигIан викIараниги, кодобе щвараб жоги букIинчIила. КIудияв ваццасс гьабигьан гьоболлъи гьабизе рокъове вачанила. ЧIчIужуялдаги абунила жидее цо лълъикIаб хъарпуз босун ячIайилан. БачIанила хъарпуз, россассни гьей, дагьабги лълъикIаб босун ячIа, дагьабги лълъикIаб босун ячIаян, лъабцIцIулго нахъюссинаюнила. Цинги, гьаб лълъикIаб бугилан ункъабилеб хъарпузги къотIун, гьабигьанассда гьадин бицанила. Хъарпуз жидер рокъоб цо гурони букIинчIила. ЧанцIцIул нахъ юссинаюниги, чIчIужуялълъ жиндир рагIи хвезабичIила. Гьединай чIчIужу йикIиналълъ жив херлъичIила. Руччабазул ссанагIат гьечIолъиялълъ, ххассго бищун гьитIинав ваццассул лълъадул квешлъиялълъ, жиндир гьитIинал ваццал гьагъадин херлъанила. 466. Россал ругез рокъоб бицунеб, къоролзабаз корохъ бицунеб. 467. Россасс гIатIада хIуччал хъвай – чIчIужуялълъул гIайиб, якьадалълъ царгъида кIулал рай – нусалълъул гIайиб. 468. Россасс лълъади хьихье, лълъецца гьобо ххене. 469. Россасс цIияй чIчIужу ячараб сордоялълъ, хварай чIчIужуялълъул бетIер горбодасса батIалъулебила. 470. Россассда лълъади лъабго къоялълъ юхIулейила, лълъадуда росс лъабго моцIцIалълъ вухIулевила. 471. Россассда рекъарабила лълъадул кIаз букIунеб. 472. Россассда ццим бахъани, чIчIужуялълъ лъимал руххулел, россассул ццим бахъани, чIчIужу юххулей. 473. Россассе индал – хIанкIич, хIорго йикIиндал – мокъокъ. 474. Россассе инегIан – эбел-инссул рукъ, тIад юссун ячIиндал – тушманасул рукъ. 475. Россассе инчIей яс ятагийин, чIчIужу ячинчIев вас ватагийилан гьарулебила гьардухъанасс. 476. Россассе инчIого, гIабдал лъаларей. 477. Россассе кьезе дир яс гIураб меххалълъищин хъалин кьолеб гIадат хвезабулебан абурабила гIандисселълъ. 478. Россассе уней ясалда эбелалълъ малълъарабила - «Дозул доба хъахIалда чIчIегIерабилан абулеб батани, дуццаги гьедин абе, дир яс, чIчIегIералда хъахIабилан абулеб батани, гьединги абе». 479. Россассеги ина, васги гьавила, вацц кисса вахъилев? 480. Россассул къадру-къимат лълъадудассан букIунеб. 481. Россассул рекIелI бугеб жо чIчIужуялълъул кIалдиб букIунеб. Цо ххан вукIаравила кидаго къватIиве вахъунарев «рокъов къурущ». Гьесс къоял инарулел рукIаралила, хъутIахIелеко гIадин, цоялгун вагъун, цоялгун семун, руччабазда гъорлI. Гьессие улка-ракьалълъул ургъелги букIинчIила. Улкаялълъул балъголъабиги, вазирзабазда лъалалдего, руччабазда лъалел рукIаралила. Мадугьалассул чучлъи бихьарав цоги хханасс гьессда лъазабурабила - «Бокьани, рагъде вахъа, бокьичIони, дие пуланал росаби кье!» – ян. Хханасс гьеб балъголъи бищунго йокьулей чIчIужуялда бицарабила, гьелълъги киналго руччабазда гIинчIарабила. Чара хварав ххан цо къоялълъ къватIиве вахъаравила. Къадал ракьандеги ракIарун, гьал гIиссинлъималаз бицунеб жого щибдаян гIенекканила. Бугила гьез бицунеб, мадугьалихъ вугев хханасс нилIер хханассда рагъ лъазабун рагIулила. Вагъизе къуватги гьечIого, чара хун нилIер хханги рагIулила. Гьеб меххалълъ кантIаравила ххан жиндирго гъалатIаздеги ххалкъияб кици битIараб букIиналдеги. 482. Россассулал – лълъадаре, лълъадулал – кIалалълъе. 483. Россги вугей къоролай. 484. Россги вукIуна, росдал гьабзацца квадги вукIуна, чIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна. 485. Россги ГIумаххан вугелълъул, мунгоги Бахху-бикайиланищ ккараб? 486. Росдае гIоло бицараб рагIи – росдае гIоло гьабураб хъулухъ. 487. Росдае ххиянат гьабурав росдал цIецца вухIаги. 488. Росдал анцIилI, бол нусилI. 489. Росдал газа кьурдаги рекIунеб. 490. Росдал гIадат хвеялдасса гIадатаб росу хвей лълъикIаб. 491. Росдал ххабар гIабдалассда гьикъе, рукъалълъул ххабар лъималазда гьикъе. 492. Росдацца хIукму кьуни, хIарпиеги бутIа кьезе кколеб. 493. Росс-лълъади мугъалисса руссараб рукъ – руссунареб сибиралълъул гвенд. 494. Росс-лълъади цолъичIони, рукъ беххе балагьула, рокъоб къир-къир цIцIикIкIани, дунялго къварилъула. 495. Росс-лълъади цоцазда лълъикI лъала, цоял унтараб меххалълъ. 496. Росс-лълъадиялда гьоркьове лIугьарав - гIабдал, гьорода бадиве кIурщарав – ахIмакъ. 497. Росс-лълъадиялълъул гьоркьоблъи лъала, росс жиндирго гурдеялда рукъи базе лIугьараб меххалълъ. 498. Росс-рукъ авадан гьаби лълъадул гьунар-цIцIар буго. 499. Россол рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 500. Росу балагьун, къватIив чIвагеги, къватI балагьун, басралъугеги. 501. Росу бахъун, кьурарай, кьибил бахъун, дургъарай. 502. Росу батIиялълъухъ рокьи ккогеги, Кьибил батIияйгун къадар хъвагеги. 503. Росу бихьун, си борххатаб бай. 504. Росу кIодо, ясал гIемер. 505. Росу лIугьун, къачIарав, кьибил лIугьун, вессарав. 506. Росу рикIкIун – гIадат, гIадан рикIкIун – ххассият. 507. Росу тани, росдаццаги толев. 508. Росу тун арав хвезе росулIе вачIунев. 509. Росу – цо рахъалда, Гьимат – цо рахъалда. 510. Росуго рекъараб кьал букIунареб, кьибилго рекъараб ригьин букIунареб. 511. Росугун дагIбадани, чиякълъула, чIчIужугун дагIбадани, кваникълъула. 512. РосулI гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве. 513. РосулIе унти я базарганассул гьирицца бачIунеб, я гьардохъанассул къвачIицца бачIунеб. 514. РосулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. 515. Роххел гIемералълъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералълъур магIихъаби рахъунел. 516. Рохол багьа къого гъурущ. Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби абун руго базаралда рахи бичулев вукIарав цо магIаруласс. Цо рохохъ къого гъурущ аби гIад гьабун буго рахи босулесс. 517. Рохоцца гIабдалги, гIакъилги, квешалги, лълъикIалги гIадамал жанире рачуна. Гьелдеги учуз буго гьаб, – ан жаваб кьун буго рахи бичулесс. 518. Рохъдол чед гьабурай, чияр чи веэдарай. 519. Рохьалълъ тала босичIого толаро. 520. РохьдолI букIунареб чIухIухъаналде ЧIалгIараб салам дир махил тIилалълъул! 521. РохьдолI тIохIок камулареб. 522. РохьдолI чIчIа, рохьдолI хва. 523. РохьдолI чIчIолареб хIайваналда тIил щола. 524. Рохьил хIайван рохьоб гурони чIчIоларо. 525. Рохьоб гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила. 526. Рохьоб хьараб хьодул пайда щибила. 527. Рохьоб цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ. 528. Рохьоб циги ххутIугеги, цого тIинчIалда божун. 529. Рохьоб чан камулареб, чорххолI унти камулареб. 530. Рохьобго гьечIеб талма, талмикьго гьечIеб гIанкIкI. 531. Рохьобе гIащтIийила, гIалххуде таргьайила. 532. Рохьобе кватIи гурони, гьаб пишаялълъул пайда гьечIилан абурабила гъадицца. 533. Рохьобе тΙил босуге, ралъдалIе лълъимги тIоге. 534. Рохьобе тIил босуге, тIилицца хур бекьуге. 535. Рохьовги вукIун, чIахIида цIа бакарав. 536. Рохьор гъутIбиги ращадал рукIунарелила. 537. Рохьосса вуссунаго, лъабоххида вачIа, дадал. 538. Роццалда рекъарабила рукъи букIунеб. 539. РоццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларебила. ВукIаравила кIиго гьудул. ЙикIарайила гьев кIияссего йокьулей цо ясги. Ясалълъги тIасса вищаравила жиндирго ракIалълъ восарав. Гьарунила гьезие лъималги, букIанила лълъикIабго магIишатги. Гьаб дунялалда лIугьунаребги кколаребги жо щибилахха букIунареб, ракIалдаго гьечIого, сапаралълъ цадахъ кканила дов кIиявго гьудул. Бихьуда росу-ракь гьечIеб цо авлахъалдассан унел рукIанила гьел. Дов ясалълъ тIасса вищичIесс, бахъун чвантинисса таманчагун, гьавцояссда абунила жинцца гьаб бакIалда мун чIвалилан. Цин гьудулассда кканила гьаб маххссара батилилан. Ххадуб, гьессда ракIалда бугеб жо маххссара гуреблъиги щай живго чIвазехъин вугевалиги бичIчIидал, гьасс абунила - - Дир хъизаналълъ доб меххалълъ, дун тIасса вищичIого, мун вищун вукIаравани, дида гьеб хIалихьатаб жо ракIалде ккелароан. Гьеб такъсир гьабуни, дирги дир хъизан-лъималазул гуребги, дуцца чIвазе буго дурго гIумруги… - Дирго гIумру дицца кин чIвалеб? Вихьулеб-рагIулеб бакIалда, инсанали щай гурин, хIайвангицин гьечIо. Лълъида лъалеб мун лълъицца чIваравали? Дицца мун цо хъитIнивеги реххила, тIаде ракьги хъвала – абадиялълъ мун вугеб бакIги лълъиданиги лъаларо! - РоццгьечIалълъ бищунги, гьаб дунялалда щибго балъго ххутIуларилан абула. Бачунге дуцца дудего тIаде гьеб балагь… Гьалмагъассул гьел рагIабазда тIадги велъун, хIалихьатицца гьессда таманча речIчIанила. Анила гьелдасса нахъе чанго сонги, ячанила дов хъурумсахъицца чIварассул йикIарай лълъадилъунги. Цо къоялълъ рагъида гIодов чIчIун россги вукIанила, гIисси-бикъинаб хIалтIуде юссун лълъадиги йикIанила. Дагьа-макъаб гьури бугеб къо букIанила гьеб. Киссан бачIарабали лъачIого, гьороцца босун бачIун, гьезул рагъида рещтIанила роццгьечI. Гьелълъухъги валагьун, росс велъанхъанила. Ссундайин мун велъарав, щибин дуда бихьарабан гьикъанила чIчIужуялълъ. Щибниги бихьичIин, ссунданиги велъичIилан чIчIанила росс. Валлагьин, жого бихьичIого, чи велъуларин, мун жинда велъанилан чIчIанила чIчIужу. Асс абунила, алълъ къотIанила, алълъ абунила, асс къотIанила, аххирги гьаб къецц квешаб рахъалде ссверанила. ЧIчIужу чIчIанила, гьабсагIат ссунда мун велъаравали бицинчIони, жий ячIарабго нухалълъ инссул рокъое инилан. Дуе квешезе бицинилан, гьассги жинццаго гьелълъул росс чIваялълъулги, гьелда ццебе ккараб ххабаралълъулги, “роццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларилан” гьесс абидал, живго велъиялълъулги бицанила. Гьалейин, гьаб роццгьечI бихьидал, кинабгоги ракIалде щун, велъанилан абунила. ЧIчIужу, гьабулеб хIалтIиги жибго тун, рокъожание анила. Гьенибго лъалинисса хханжарги бахъун, гIодов чIчIарав россассда асскIое ячIанила. Гьелейинхха, битIараб букIун бугин жиндир россасс абураб жойилан, хъубухъун босун къазабунила гьессул чохьолI хханжар. Цинги, жинццаго гьабураб жо бицине, росдал бегавулассухъеги ячIарайила. 540. Роцц унтичIого, хоно букIунареб (роцц унтичIого, гIанкIуялълъ хоноги гьабулареб). 541. Роццадасса цIцIикIкIун, чуги кIанцIуларо. 542. Роцен гьечIеб гIемераб квеналдасса цо роццада кунеб дагьаб квен лълъикIаб. 543. Роцен гьечIеб тIехх хханассул тепсиялдаги букIунареб. 544. РоцIцIагиян цIцIани, цIцIад багиян буртIал. 545. РоцIцIараб зодиссан цIцIер балев Аллагь. 546. РоцIцIараб къоялълъ цIцIаназде цIцIаладерил ясалги унел. 547. Роччухъе дунялги букIунаребила, вачIухъе гьоболги вукIунаревила. 548. Ругезда гьечIеланищан, гьечIезда ругеланищан ккарал жалила лъимал. 549. Ругел-гьечIел лъаларел щайтIабакьа щайила хIинкъулел, гьал къойил рихьулел щайтIаби-гIадамакьа щайила хIинкъуларел. 550. РугънатIе цIцIам щвалареб. 551. Ругъун лъечIого, би бецIцIулареб, цIцIад бачIого, тIох гIекколареб. 552. Ругъун сахлъаниги, гIуж кибего унареб. 553. Ругьунаб гуреб роццалда тIажу рекъоларебила. 554. Ругьунаб оцалълъ гIадин хур бекьуларо. 555. Рузида къад канлъи бихьунгутIи бакъул гIайиб гуреб. 556. Рузман чIирчIидулеб, шамат бадарулеб. 557. Рузманкъо битIани, киналго къоял ритIулел. 558. Рукъ бакъараб ссадакъа гьабуге. 559. Рукъ бакъараб ссадакъа – чехь бакъараб къадеквен. 560. Рукъ бала гIадамал цIунизе, ярагъ бала гIадамал гъуризе. 561. Рукъ берцинлъула къачIаялълъ, чи берцинлъула гIелмуялълъ. 562. Рукъ бечелъаги, чи гIемерлъаги. 563. Рукъ бикъидал, къоно тIамурав (Рукъ бикъун ххадуб гуребила къоно тIамулеб). 564. Рукъ босилалде, мадугьал цIеххе. 565. Рукъ гьабулареб жоялълъ къватI гьабулареб. 566. Рукъ гьечIелълъуб хъошги рукъила. 567. Рукъ гьечIессда чи лъала, чед гьечIессда мацIцI лъала. 568. Рукъ гьитIинаб букIин гьоболассдайила лъалеб. 569. Рукъ къваридав чи – лълъади квешав чи. 570. Рукъ лълъухьараб меххалълъ, хIур бахъунеб гIадат. 571. Рукъ рукъалълъ тIубаги, къайи къайиялълъ цIунаги. 572. Рукъалда асскIоб цIцIорораб иццги тун, хьуцIцIил лълъеда ххадув довегIан унарев. 573. Рукъалда лъалареб къватIалда лъан батулеб, нилIедаго бихьичIеб чияда бихьун батулеб (НилIер – чияда, чияр – нилIеда). 574. Рукъалда нах бахунареб даранги гьабуге, гьойдул балъ гьабулев чи гIадин, гIададаги хIалтIуге. 575. Рукъалда нуцIцIа гьечIев, ахикье гъалду гьечIев. 576. Рукъалда нуцIцIа лъолеб рагьизеги къазеги. 577. Рукъалдасса ххирияб бакІ гьечIеб, лъимадасса ххирияб жо гьечIеб. 578. Рукъалълъ басра гьавурав къватIалълъ ццеве кколарев. 579. Рукъалълъ бетIергьанчи гурев берцин гьавулев, бетIергьанчиясс рукъин гьабулеб. 580. Рукъалълъе кинаб бугониги пайда гьабичIеб къо – гIадада араб къо. 581. Рукъалълъул асслу – кьучIчI, хъизамалълъул асслу – чIчIужу. 582. Рукъалълъул бетIергьанасс гьумер битІичIони, гьобол тIокIав вачIунарев, тIилил бухIи гIезабуни, кето баккарулареб. 583. Рукъалълъул бетIергьанассде мутIигIлъулареб рокъоб гIадлу букIунареб. 584. Рукъалълъул гьечIолъи царгъицца баххчула, черххалълъул гьечIолъи тIингъицца баххчула. 585. Рукъалълъул иххтияр бетIергьанчияссухъ тейила. 586. Рукъалълъул къварилъи къадазда лъала, Дир рекIел къварилъи дидаго лъала. 587. Рукъалълъул къварилъи къватIиб лъагеги, къватIул ххабар рокъоб лъагеги. 588. Рукъалълъул кIалтIа хIелекоги багъулеб, кавудал кIалтIа лъималги рагъулел. 589. Рукъалълъул кIудияв меххтичIони, бертин бетулареб. 590. Рукъалълъул хIал лъималазда лъала, къватIалълъул хIал гIабдалассда лъала. 591. Рукъалълъул ургъел къадаздаги лъалеб. 592. Рукъи бай, каратI кIодолъилалде, дару гьабе, унти ххалалъилалде. 593. Рукъи бараб бугониги, ретIелги гIолеб, хъош гIадаб бугониги, рукъги бегьулеб, мамá гьечIого, чи тIуваларев. 594. Рукъи бараб ретIел ретIунаревги чи гуревила, рукъиялда тIад рукъи баравги чи гуревила. 595. Рукъзал кунарел, кули ретIунареб. 596. Рукъилан абураб бакIалде рукъгIанассеб гьецIцIо босулеб. 597. РукIкIадул рорлIигIанассеб картIиниссан оцол бетIергIанассеб квач бачIунебила. 598. РукIкIен аралълъубейила кунги унеб 599. РукIниб букIун гъулгъудун, гъалбацIалълъ чан чIваларо. 600. Румазул гулгун гIадин, габур цIцIабуцIцIунги вукIунге, эбел-эмен хварав гIадин, гIодовеги къулуге. 601. Руссун херлъичIони, чу херлъуларо. 602. Рухьен тIун, тIил бекун, виччарав. 603. РухI бащад буго, рукь бащад цIцIай! 604. РухI бихьунила хIанчIидасса би баккулеб. 605. РухI речIчIилалде тушман чIваларев рухI речIчIараб меххалълъ тушманасс чIвалев. 606. РухIалда рекъонила биги тIинкIулеб. 607. РухIалицца гIадин чи херлъуларо, мискинлъиялълъ гIадин чи къулуларо. 608. РухIел кIочон тезабулеб ракъиялълъ, квен кIочон тезабулеб ццидацца. 609. Ручун кIудияб – жаниб рак гьечIеб, тIину кIудияб – жаниб мугь гьечIеб. 610. Руччабазда балъгояб жо жундуз бицунебила. 611. Руччабазул базаралълъ рукъ ццебе тIоларо. 612. Руччаби кIодо гьарулел лълъикIав чиясс, ятим инжит гьавулев хIалихьатав чиясс. 613. Рущада гьабураб мусрада гурони толареб. 614. Рущи щваралълъубе гIанкIу бачIунеб, жалго реэдаралълъуре лъимал рачIунел. 615. Рущи щваралълъубе гIанкIу буссуна, каву кIудиялълъуве гьардохъан ссверула.
- kk | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
Сс S Ссабру алжаналълъул кIулила. Ссабру гьабулеб бугилан чи валъаргъунге, си гIураб меххалълъ, биххулебин. Ссабру гьаби гIоларо, рекIелI гIакълу гьечIони. Ссабру гьабурассе пайда кIудияб. Ссабру гьечIев чияссул гьабун жо релълъунаро. Ссабру – гIакълуялълъул ххан. КIудияв чиясс васассул васассда малълъулеб букIун буго, ворехха, дир вас, мун ххеххдаруге, гIакълуялълъул ххан ссабруйин кколеб. ЧIчIужу ячун мехх бахъилалдего, гьев ккун вуго рагъде. Рокъове щвечIого, ун руго гIемерал санал. Гьасс пикру гьабулеб букIун буго чIчIужу жиндие ххияналъанадай, россассе анадайилан... Аххирги гьав щун вуго сардилI жиндирго минаялде. Цин рокъове лIугьиналде, тIохдеги вахун, ццебетIалаялдассан рокъове валагьараб меххалълъ, бихьун буго таххида вегун цо бихьинчи вукIинги, гьессул бетIералда кверги лъун, жиндирго чIчIужу йикIинги. КIудияв инссул малълъ босичIев ххеххдарухъанасс, жанивеги лIугьун, цин хханжар кьабун буго бихьинчияссда, ракIалда букIун буго чIчIужуги чIвазе. «Вай! ЧIвана гури дуцца дурго унтарав вас!» – ан чIчIужу тIад ххурххараб меххалълъ, бичIчIун буго гьессда ссабру гIакълуялълъул ххан букIин. Ссабру тIагIарассухъа тIад гьабун жо босуге. Ссабру ццебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе. Ссабруялда чIчIарассе пайда камулареб, ххеххдарухъанассул ххиялал хIорго ххутIулел. Ссабруялълъ мегIер лълъухъалеб. Ссабруялълъул тIиналда – багIараб месед. Ссабуралълъул аххада - роххел. Ссабруялълъул тIиналда тIогьол майдан рагIула. Ссабурассе – бохх, виххарассе – ратIа. Ссадакъа кье кваранаб квералълъ, кьураблъи квегIаб квералда лъаларедухъ. (Квараналълъ кьураб квегIалда лъазе кколареб). Ссадакъа кье рукъ бакъулареб, хIалтIи гьабе черхх чIвалареб. Ссадакъаги къадеквенги – дагьаб жо. Ссадакъаялълъ хьихьулессул къадруги букIинаро, бараб гIетIалълъ тIувалессул къиматги хвеларо. СсахIие жо рокъоб гьечIей, къолоде жо тIад ретIуней. СсахIил пайда гьабулаго, къолол зарал ккарабила. СсахIилги роцен лъазе ккола. СсахIихъ ссахI гурони щолареб. СсахIицца къеларо, къолоцца бергьинаро (Жо гуреб жоялълъул бицунге). СсахIицца хIама цIцIараб, рахъицца оц цIцIараб (хIал щун, унтараб). Ссвакарассда нух гурхIулареб, вакъарассда чед гурхIулареб. СсваквачIого чIчIани, чIчIечIого вилълъине кколев. Ссванилан ккараб цIа рекIинеги бегьулеб, ссванилан тараб питна цIилъизеги бегьулеб. Ссвараб ххвалчен, чарххида ккуни, рекIуна; гIантав чияссулги, гIадамалълъе вахъани, мадар лIугьуна. Ссверун къачIеб азбар – цаби гьечIеб кIал. СсалихIицца жергъен гIадин, рекъезабе. Ссан – дуе, хур – дие, бекьизе – дуе, кваназе – дие. СсанкIиний лъуниги, чIчIужугIадан цIунун бажаруларей. СсогIаб чу бичула, квегъуд буссунареб бугъа хъола. Малълъараб гьабуларей чIчIужуялда щиб гьабилеб? СсугъралIа чиясс гьабураб жо анкьго соналдассан гурони тIатунаребила. Ссугъур къан букъе, къехь биччан букъе. Ссундуе букIаниги, пал лълъикIаб къотIе. Ссундуего жиндир заман, ххасало-гIазу, риидал-цIцIад. СсундулIго роцен букIине кколеб. Ссундулго аххир букIунеб, анищалълъул бицен ххутIулеб. Ссургу гIадинги вукIунгейила, жини гIадинги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила (Ссургу гIадин хъалалъанги вукIунгейила, жини гIадин гъорлIанги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила). Ссуриялдасса хвелго лълъикIила. Ссурун хвей – кIицIцIул хвей.
- q | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
С s 1. Сабаб тIагIараб жо – гIажал, гIадан холеб жо – ххиял. 2. Саву кьарияб, кьаву хIалакъаб. 3. Саву кьун, кьаву босуге. 4. СагърикьотIа гьабураб ГьимагIурухъ батулеб. 5. СагIат гьечIеб рукъ – гIака гьечIеб бокь. 6. СагIат гьечIев беццав, рузнама гьечIев рекъав. 7. СагIаталълъул гIадлу соналълъул гIибадаталдасса лълъикIаб. 8. СагIатгIан ххалатабги букIунебила къо, лъагIелгIан ххалатабги букIунебила. 9. Сайигъат бачIарав – таххида, бачIинчIев – туртида. 10. Сайигъаталълъе кьоло-гъолон чу щварасс цадахъ ярагъги щай гьечIебилан абурабила. 11. «Салам гIалайкумалълъ» гIи гъурараб, апарагасс росу хвараб. 12. Саламалда рекъарабила жавабги букIунеб. 13. Сапаралдасса, гамачI босунги, чIорого рачIунгейила. 14. Сапаралде вахъунесс хъабарча рокъоб тоге. 15. Сапарцадахъ лъазе бокьани, гьессул хьитинибе чIимихх реххейила. 16. Сапнацца чурунилан чIчIегIерцIцIвак хъахIлъиларо. 17. Сариси гуреб букIун бугеб, тIатIи букIун буго (ХIамида оххцер квине щибила лъалеб). 18. Сардил ххалалъи лъалеб унтарассда, къойил ххалалъи лъалеб вакъарассда. 19. Сасу бекуларо, кун тIечIелдасса. 20. Сасу кьун, рукIкIен кьунила рокьи гьабулеб. 21. Сахаб гьой гважуда тIад речIчIулареб. 22. Сахав бахIарчияссе нусго гьунарги дагьаб. 23. Саххаватасс мусру чиядаги балебила, къарумасс жиндаго барабги кIкIунебила. 24. Сахлъи бокьани, бетIер гьогьмада, хIатIал ххинлъуда, чехь бакъун хьихьейила. Кибего цIцIар рагIарав тоххтир вукIаравила. ГIадамаз гьессда абулеб букIарабила, Аллагьассул къадаралде щоларев чиги вукIанарин, дуцца дурго устарлъиялълъул балъголъи, цадахъ босичIого, ххадур рачIунезе цIунун щайин толареб. Гьессги абулеб букIарабила, жинцца гьеб цадахъ босиларин, жив хун ххадуб, жиндир гъанссинире раккейин, гьениб батилин нужеда жиндир гьунаралълъул балъголъи хъвараб тIехь. Хванила тоххтир. Ракканила гьессул гъанссинире. Батанила гьениб цIакъ щулаго бухьа-къараб жо. Цо бечедав чиясс, ирсилаз абураб багьаги кьун, босарабила гьеб. Бихха-бичараб меххалълъ гьениб батарабила тIехь. Гьелълъул тIоццебессеб гьумералда ратаралила кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби, цогидал гьурмазда щибго хъван батичIебила. 25. Сахлъи букIаго, хIалтIи гьабе, черхх букIаго, ретIел ретIе. 26. Сахлъи гьечIеб унтудассаги нагагьаб балагьалдассаги цIунаги. 27. Сахлъи гьечIев хханассдасса сахлъи бугев лагъго талихIавила. 28. Сахлъи гьечIессе бечелъи щай? 29. Сахлъиги кьун, унти босарав. 30. Сег кванараб чода канлъи бихьулареб, бечелъараб меххалълъ чияссда чияр гIакълу берцин бихьулареб. 31. СихIираб гьимиялдасаги цIунаги, гьуинаб реццалдассаги цIунаги. 32. СихIирав гIабдал. 33. СихIирав чияссулгун даранги гьабуге, гIантав чияссулгун оцги баге. 34. Сордо базаеян гъотIода рещтIараб гъеду гIумруялълъго гьениб ххутIун рагIула. 35. Сордо бачIунареб къо букIунареб. 36. Сордо бецIцIаб бугогIан, цIцIваби гвангъун рукIуна. 37. Сордо къватIиб – ххинкI рокъоб. 38. Сордо сардие те. 39. Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна. 40. Сордо-къо цIцIикIкIарассул гIакълу цIцIикIкIараб. 41. Суалалда рекъон, къокъ гьабун, кье жаваб. 42. Сумал чIалу гьабуге, гьалил михир гьабуге. 43. Сумалда сум лъуни, гул лIугьунеб. 44. Сусур цIцIикIкIаралълъуб бугIа дагьаб, рагIи гIемералълъуб гIакълу дагьаб. 45. Сусур чIаралаго, ролIул чIорал гьоркьоре ккунги ратулел, гIакайилан ккун, хIама бечIчIулелги ратулел.