top of page

Результаты поиска

1985 results found with an empty search

  • y | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    С s 1. Сабаб тIагIараб жо – гIажал, гIадан холеб жо – ххиял. 2. Саву кьарияб, кьаву хIалакъаб. 3. Саву кьун, кьаву босуге. 4. СагърикьотIа гьабураб ГьимагIурухъ батулеб. 5. СагIат гьечIеб рукъ – гIака гьечIеб бокь. 6. СагIат гьечIев беццав, рузнама гьечIев рекъав. 7. СагIаталълъул гIадлу соналълъул гIибадаталдасса лълъикIаб. 8. СагIатгIан ххалатабги букIунебила къо, лъагIелгIан ххалатабги букIунебила. 9. Сайигъат бачIарав – таххида, бачIинчIев – туртида. 10. Сайигъаталълъе кьоло-гъолон чу щварасс цадахъ ярагъги щай гьечIебилан абурабила. 11. «Салам гIалайкумалълъ» гIи гъурараб, апарагасс росу хвараб. 12. Саламалда рекъарабила жавабги букIунеб. 13. Сапаралдасса, гамачI босунги, чIорого рачIунгейила. 14. Сапаралде вахъунесс хъабарча рокъоб тоге. 15. Сапарцадахъ лъазе бокьани, гьессул хьитинибе чIимихх реххейила. 16. Сапнацца чурунилан чIчIегIерцIцIвак хъахIлъиларо. 17. Сариси гуреб букIун бугеб, тIатIи букIун буго (ХIамида оххцер квине щибила лъалеб). 18. Сардил ххалалъи лъалеб унтарассда, къойил ххалалъи лъалеб вакъарассда. 19. Сасу бекуларо, кун тIечIелдасса. 20. Сасу кьун, рукIкIен кьунила рокьи гьабулеб. 21. Сахаб гьой гважуда тIад речIчIулареб. 22. Сахав бахIарчияссе нусго гьунарги дагьаб. 23. Саххаватасс мусру чиядаги балебила, къарумасс жиндаго барабги кIкIунебила. 24. Сахлъи бокьани, бетIер гьогьмада, хIатIал ххинлъуда, чехь бакъун хьихьейила. Кибего цIцIар рагIарав тоххтир вукIаравила. ГIадамаз гьессда абулеб букIарабила, Аллагьассул къадаралде щоларев чиги вукIанарин, дуцца дурго устарлъиялълъул балъголъи, цадахъ босичIого, ххадур рачIунезе цIунун щайин толареб. Гьессги абулеб букIарабила, жинцца гьеб цадахъ босиларин, жив хун ххадуб, жиндир гъанссинире раккейин, гьениб батилин нужеда жиндир гьунаралълъул балъголъи хъвараб тIехь. Хванила тоххтир. Ракканила гьессул гъанссинире. Батанила гьениб цIакъ щулаго бухьа-къараб жо. Цо бечедав чиясс, ирсилаз абураб багьаги кьун, босарабила гьеб. Бихха-бичараб меххалълъ гьениб батарабила тIехь. Гьелълъул тIоццебессеб гьумералда ратаралила кицилъун лIугьарал гьадал рагIаби, цогидал гьурмазда щибго хъван батичIебила. 25. Сахлъи букIаго, хIалтIи гьабе, черхх букIаго, ретIел ретIе. 26. Сахлъи гьечIеб унтудассаги нагагьаб балагьалдассаги цIунаги. 27. Сахлъи гьечIев хханассдасса сахлъи бугев лагъго талихIавила. 28. Сахлъи гьечIессе бечелъи щай? 29. Сахлъиги кьун, унти босарав. 30. Сег кванараб чода канлъи бихьулареб, бечелъараб меххалълъ чияссда чияр гIакълу берцин бихьулареб. 31. СихIираб гьимиялдасаги цIунаги, гьуинаб реццалдассаги цIунаги. 32. СихIирав гIабдал. 33. СихIирав чияссулгун даранги гьабуге, гIантав чияссулгун оцги баге. 34. Сордо базаеян гъотIода рещтIараб гъеду гIумруялълъго гьениб ххутIун рагIула. 35. Сордо бачIунареб къо букIунареб. 36. Сордо бецIцIаб бугогIан, цIцIваби гвангъун рукIуна. 37. Сордо къватIиб – ххинкI рокъоб. 38. Сордо сардие те. 39. Сордойилго вачIани, вокьулевги чIалгIуна. 40. Сордо-къо цIцIикIкIарассул гIакълу цIцIикIкIараб. 41. Суалалда рекъон, къокъ гьабун, кье жаваб. 42. Сумал чIалу гьабуге, гьалил михир гьабуге. 43. Сумалда сум лъуни, гул лIугьунеб. 44. Сусур цIцIикIкIаралълъуб бугIа дагьаб, рагIи гIемералълъуб гIакълу дагьаб. 45. Сусур чIаралаго, ролIул чIорал гьоркьоре ккунги ратулел, гIакайилан ккун, хIама бечIчIулелги ратулел.

  • u | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Чч X ЧчугIа кколессул роц лълъелIила букIине кколеб. Ччузе бокьулев, ххузе бокьуларев вукIунарев.

  • d | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Сс S Ссабру алжаналълъул кIулила. Ссабру гьабулеб бугилан чи валъаргъунге, си гIураб меххалълъ, биххулебин. Ссабру гьаби гIоларо, рекIелI гIакълу гьечIони. Ссабру гьабурассе пайда кIудияб. Ссабру гьечIев чияссул гьабун жо релълъунаро. Ссабру – гIакълуялълъул ххан. КIудияв чиясс васассул васассда малълъулеб букIун буго, ворехха, дир вас, мун ххеххдаруге, гIакълуялълъул ххан ссабруйин кколеб. ЧIчIужу ячун мехх бахъилалдего, гьев ккун вуго рагъде. Рокъове щвечIого, ун руго гIемерал санал. Гьасс пикру гьабулеб букIун буго чIчIужу жиндие ххияналъанадай, россассе анадайилан... Аххирги гьав щун вуго сардилI жиндирго минаялде. Цин рокъове лIугьиналде, тIохдеги вахун, ццебетIалаялдассан рокъове валагьараб меххалълъ, бихьун буго таххида вегун цо бихьинчи вукIинги, гьессул бетIералда кверги лъун, жиндирго чIчIужу йикIинги. КIудияв инссул малълъ босичIев ххеххдарухъанасс, жанивеги лIугьун, цин хханжар кьабун буго бихьинчияссда, ракIалда букIун буго чIчIужуги чIвазе. «Вай! ЧIвана гури дуцца дурго унтарав вас!» – ан чIчIужу тIад ххурххараб меххалълъ, бичIчIун буго гьессда ссабру гIакълуялълъул ххан букIин. Ссабру тIагIарассухъа тIад гьабун жо босуге. Ссабру ццебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе. Ссабруялда чIчIарассе пайда камулареб, ххеххдарухъанассул ххиялал хIорго ххутIулел. Ссабруялълъ мегIер лълъухъалеб. Ссабруялълъул тIиналда – багIараб месед. Ссабуралълъул аххада - роххел. Ссабруялълъул тIиналда тIогьол майдан рагIула. Ссабурассе – бохх, виххарассе – ратIа. Ссадакъа кье кваранаб квералълъ, кьураблъи квегIаб квералда лъаларедухъ. (Квараналълъ кьураб квегIалда лъазе кколареб). Ссадакъа кье рукъ бакъулареб, хIалтIи гьабе черхх чIвалареб. Ссадакъаги къадеквенги – дагьаб жо. Ссадакъаялълъ хьихьулессул къадруги букIинаро, бараб гIетIалълъ тIувалессул къиматги хвеларо. СсахIие жо рокъоб гьечIей, къолоде жо тIад ретIуней. СсахIил пайда гьабулаго, къолол зарал ккарабила. СсахIилги роцен лъазе ккола. СсахIихъ ссахI гурони щолареб. СсахIицца къеларо, къолоцца бергьинаро (Жо гуреб жоялълъул бицунге). СсахIицца хIама цIцIараб, рахъицца оц цIцIараб (хIал щун, унтараб). Ссвакарассда нух гурхIулареб, вакъарассда чед гурхIулареб. СсваквачIого чIчIани, чIчIечIого вилълъине кколев. Ссванилан ккараб цIа рекIинеги бегьулеб, ссванилан тараб питна цIилъизеги бегьулеб. Ссвараб ххвалчен, чарххида ккуни, рекIуна; гIантав чияссулги, гIадамалълъе вахъани, мадар лIугьуна. Ссверун къачIеб азбар – цаби гьечIеб кIал. СсалихIицца жергъен гIадин, рекъезабе. Ссан – дуе, хур – дие, бекьизе – дуе, кваназе – дие. СсанкIиний лъуниги, чIчIужугIадан цIунун бажаруларей. СсогIаб чу бичула, квегъуд буссунареб бугъа хъола. Малълъараб гьабуларей чIчIужуялда щиб гьабилеб? СсугъралIа чиясс гьабураб жо анкьго соналдассан гурони тIатунаребила. Ссугъур къан букъе, къехь биччан букъе. Ссундуе букIаниги, пал лълъикIаб къотIе. Ссундуего жиндир заман, ххасало-гIазу, риидал-цIцIад. СсундулIго роцен букIине кколеб. Ссундулго аххир букIунеб, анищалълъул бицен ххутIулеб. Ссургу гIадинги вукIунгейила, жини гIадинги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила (Ссургу гIадин хъалалъанги вукIунгейила, жини гIадин гъорлIанги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила). Ссуриялдасса хвелго лълъикIила. Ссурун хвей – кIицIцIул хвей.

  • xx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Хх { 1. Ххабар бицун лIугIулареб, рокьи гьабун бахъунареб. 2. Ххабар, гьуин букIаго, лIугIизе те. 3. Ххабар гьуинаб буго – лъалеб жо дагьаб буго. 4. Ххабар дие бицун, роххдухъа моцIцIу чияе кьун. 5. Ххабар къокъ гьабе, къо-мехх лълъикI гьабе. 6. Ххабар ххалат гьабуге, гьикъаралда рекъон, къокъго бице. 7. Ххабарххалат – хIалтIидагь. 8. Ххадуб гъезеян тедалила къоркъода рачIчI гъечIого ххутIараб. 9. Ххадуб кколелълъул хIисаб гьабуни, бахIарчи вахъунаро (Шамил-имамассул рагIаби). 10. Ххадуб ракI бухIулеб рагIи бицунгейила. 11. Ххадуб ххутIараб жо бацIицца чIвалеб. 12. Ххадув хварав ххадув вукъулев. 13. Ххадув пашманлъиялълъул нахъа ххайир щолареб. 14. Ххазинадай гIарац те, гIедал яс россассе кье. 15. Ххал гьабуни, бихьула, бихьарассда бичIчIула, бичIчIарассда жо лъала, лъарав чи витIун ккола. 16. Ххалат арав вуссаравила, къокъид арав вуссинчIевила. 17. Ххалат бухIагийила ччохIол мугъзада бакъ. 18. Ххалатаб къокъ гьабизе бигьаяб, къокъаб ххалат гьабизе захIматаб. 19. Ххалатасс къвал цIурабила, къокъасс магь баччарабила. 20. Ххалатассул къвалакье щвечIев, къокъассул магжикье щвечIев. 21. Ххалкъалда вихьизе щобде вахинеги ккогеги, гIадамаздасса ваххчизе кIкIалахъе лIугьинеги ккогеги. 22. Ххалкъалда гьоркьоб къадру хвеялдасса, къадарги щун, къанабакье ккей лълъикIаб. 23. Ххалкъалда нух къосунареб. 24. Ххалкъалде балагь бачIин хханассул гIайиб. 25. Ххалкъалълъ нагIана кьуни, кьуруги биххулеб. 26. Ххалкъалълъул жугьа – ралъдал карачел. 27. Ххалкъалълъул рагIи битIараб. 28. Ххалкъалълъул тушман – къаццандухъан. 29. Ххалкъул гIаламалълъе гIищкъул кьоги бан, дун кьодукь ххутIана, кьодул сакги тIун (дун къотIнов ххутIана къадал ракьанда). 30. Ххамиз сордо кинаб магIидаян абурабила сордо цIцIарай ясалълъ. Кици бижун буго сордо цIцIарай бахIаралда тIад. МагIарулазул гIадаталда рекъон, яс россассе кьола итни яги ххамиз сордоялълъ. НилIер бахIаралълъе цIцIан букIун буго ххамиз сордо. Эбелалълъ гьей йитIун йиго доба магIида бан бугеб цIцIалкIу босун ячIаян. Ясалда цIцIалкIу батун гьечIо. РекIел цо анищ бугей ясалълъухъа тоххаб суал борчIун буго - «Эбел, ххамиз сордо кинаб магIида»? 31. Ххамил базарган, мусру гьечIого, вукъаравила. 32. Ххан нилIер гьобол гуро. 33. Ххан хведал вецце, лъимал гIедал рецце. 34. Ххан хола, лагъги хола – кIиялго бащалъула. 35. Хханазда тIад кIусараб гIанкIу гIадин. 36. Хханасс кьураб чол кIалдире раккуларел. 37. Хханасс цIияб чухъа ретIани, баркулебила, мискинчиясс ретIани, гьаб кисса щварабилан гьикъулебила. 38. Хханассда асскIоб кIиго ламадур квани, цояб магIарзухъан бачIунебила. 39. Хханассде лълъикIав чиян абе, хабада ххухх-бурутI гIорцIцIизе ххер бижараб меххалълъ. 40. Хханассда нич гьечIеб, гьарчида бер гьечIеб. 41. Хханассда ццевессанги чода нахъассанги вилълъунге. 42. Хханассда тIад ххан толарев. 43. Хханассул берталълъе гьанал бохх босун унел, мискинассул берталълъе квер хьвагIун унел. 44. Хханассул бокьове хIарамав гьессул кIалгIаялде унарев. 45. Хханассул рокъоб дир гIакълу рекъоларо, дир рокъоб хханассул гIакълу рекъоларо. 46. Хханассул ххазинаялда камураб мискинчиссул анищазулI батарабила. 47. Хханассул цо ххиянат бихьани, ххалкъалълъ азарго ххиянат гьабулеб. 48. Ххангишил хIелеко гIадин, уне-унев ххутIагийила. 49. Хханжар цIулал бугониги гIола, ракI маххул бугони. 50. Хханжу тIагIине бокьани, тIепун ххинкIал гьарейила, квас тIагIине бокьани, буртаби ругIейила. 51. Хханзабазда ххадубги хвел бугеб, тIадегIанал къоязеги аххир бугеб. 52. Хханзабазулги ххан – маххщелила. НекIо заманалда цо улкаялда вукIаравила цо ххан. ГIакъилавги вукIаравила гьев, бахIарчиявги вукIаравила. Гьеб букIанила рагъ-кьал гIемераб заман. Жал теларилан лIугьарав тушманассдасса улка гьесс бигьаго цIунулаанила. ГIовул гIужде ваханиги, ххан гIедегIулев вукIинчIила чIчIужу ячине. Цо нухалълъ хханассда гьессул гIакълучиясс абунила - «БетIер чIахъаяв ххан! Рагъ-кьал гIемераб заманги бугелълъул, нилIеда гьикъун къадарги щоларелълъул, дуего ирсилавги вукIине, чIчIужу ячун лълъикI гуродай дуцца?» Ххан цин вуцIцIун чIчIанила, цинги гIакълучияссе баркала кьунила. «Валлагь, битIараб буго гIакълучиясс бицунеб жо. Дун рагъда чIвани яги бусада вегун хвани, гьечIо гури дир ирс босизе чи», – ян пикру гьабунила. Ячун лълъикIин чIчIужуян ракIалде кканила гьессда. Гьаниб бачIанила щий ячиней абураб суалги. РекIее къабулай гIадан хханассул йикIинчIила. «Ца таралълъ мегIер толилан» абула, ххеххго тIибитIанила ххан чIчIужу ячине хIадурлъулев вукIиналълъул ххабар. Мадугьалихъ ругел хханзабазе бокьун букIанила гIолохъанав, гучав хханассулгун гIагарлъи гьабизе. Гьез чапарзаби ритIулел рукIанила гIолохъанав хханассухъе. Гьевин абуни гIедегIулев вукIинчIила рагIи кьезе. Цо къоялълъ цадахъ вазирзаби, нукарзабигун чанасса вуссун вачIунев вукIанила ххан. Гьезда данде кканила, цIулал магьги баччун ячIуней бадиссан бакъ баккарай гIадай берцинай яс. Рачлихъе щвезегIан гIодоеги къулун, хханассе салам кьунила ясалълъ. Гьей ясалълъул берзул чIоралълъ гулицца гIадин жиндир керен борлIанилан кканила хханассда. Гьессни хIал лъазе течIила. Жиндирго хханассулаб къадруги цIунун, тIокIав ясалълъухъги валагьичIого, анила ххан. Рокьи бугила рокьи. Гьелълъ ватIа гьавуларила хханги лагъги. Рокьул цIа рекIанила хханассда – кванан квен билълъунарила, гьекъон лълъим унарила, къасси макьу щоларила. Цо рахъалълъ, хханасс пикру гьабулеб букIанила: «Кин ячиней щияли лъаларей нухда дандчIварай яс?» Дой яс гьечIеб гIумруги гIумру гуреблъи бичIчIулеб букIанила гьессда. АхIанила гьесс жиндирго вазирзаби. Лъазабунила гьезда, ракьулIа яхъунги, ххеххлъи гьабун, дой берцинай яс ялагьеян. Анила нукарзаби рахъ-рахъалде. Анила цо къо, анила лъабго къо. Ункъабилеб къоялълъ, ячун ясгун, гьелълъул эбел-эменгун, тIад руссанила гьел. Ясалда ва гьелълъул эбел-инссуда тIад ретIун бугоанила тIутIу-хъухъураб ретIел. Хханасс буюрухъ кьунила гьезда берцинаб ретIел ретIеян. Гьанибни кканила лълъиданиги ракIалда букIинчIеб жо. Ясалълъ цIехханила хханассул маххщел-пиша щибин бугебилан. Ххан велъанила. - Щиб гьабизе дие маххщел? Ххан вукIин гIоларищ дие? – ян абунила гьесс. Гьеб меххалълъ ясалълъ абунила: - Мун ххан вукIин – гьеб цIакъ лълъикI буго. Хханго ххан вугониги, цо маххщелги букIине ккола чияссул. Маххщел ккола хханзабазулги ххан. Ххан тамашалъун валагьанила ясалълъухъ. ГьечIин жиндир маххщелилан абунила гьесс. Цо маххщалие гьев ругьунлъичIони, жий гьессие инарилан чIчIанила яс. Рес букIинчIила: яс щвезе ккани, бокьаниги бокьичIониги, лъазабизе кколеб букIанила цо маххщел. ГIарац-меседалълъул машгьурав устарассухъе хьваданила ххан тIубараб лъагIелалълъ. Ругьунлъанила гьев маххщалие, цинги балагьун бер гIорцIцIулареб курхьенги гьабун, вачIанила ясалълъухъе. - Гьалехха тIатун буго дулI баххчун букIараб кIудияб гьунар. Гьанже дун дур йиго! – ян абунила ясалълъ. Бертаде къо цIцIан букIанила. Чанавени арав ххан тIагIанила. Анила къоял, анила моцIцIал. Ххан вачIунев вукIинчIила. Цо нухалълъ гIолохъанав хханассул улкаялде даран-базаралълъе рачIанила мадугьалихъ бугеб хханлъиялдасса даранчагIи. Хханассул абуралълъухъе росун рачIанила берцинал курхьаби, хIикматал баргъичал. Бер кIутIарабго лъанила гьелда баргъич хханасс гьабураб букIин. Ясалълъ даранчагIазда гьикъанила баргъичал лълъицца гьаруралилан. ДаранчагIаз бицанила: Нижер хханассул вугила цIакъ гьунар бугев устар. Жидеда гьев киданиги вихьичIила. Бицунеб рагIанила хханасс асир гьавун вачIарав чи вугилан. Гьев гьунар тIокIав устарассдасса ватIалъизе гурилан, хъалаялълъув хьихьун вугила хханасс гьев. ГьебсагIатго, хханассул боги бачун, къватIие яхъанила бахIарай. Щущахъ риххизарун тушманассул боялгун, ххвассар гьавунила гIолохъанав ххан. Рокъоре щвейгун, гьабунила бертин... - Дуцца абухъе, хханзабазулги ххан букIун буго маххщел, – ан абунила гIолохъанав хханасс жиндирго лълъадуда. 53. Хханзаби лъолебги – цохIого гванда, лагъзал регьулебги – гьагъабго гванда. 54. Хханинибго чIичIидараб тIанчIил бетIер чIчIинтIейила. 55. Хханинийго чIичIидарай, чIаратIаго гаргадарай. 56. Хханлъиялдасса Аллагьасс реххиялдасса хханлъи жинццаго реххи лълъикIаб. 57. Ххарадуниб щвараб лъимер лъезе бакI тIагIун рукIунел, къокъид щвараб боцIцIуда гьабизе жо тIагIун рукIунел. 58. Ххарадунибги щвезе бегьулебила дарс. Херав чи сапаралълъ вахъине кканила. Кинниги нусгогIан сонги бан бугелълъул, цадахъ щуго сон барав васассул васги вачанила. ЦIакъ бакъ рагIараб къоги букIанила, ццебе жиги ххалатаб нухги букIанила. Къаденахъеялде тату хванила херассул, вилълъине захIмалъанила. ЧIанила хIухь бахъизе гIодор. Гьелълъ херассе кумек гьабичIила. Гьассда ракIалде кканила жиндие хвел гIагарлъулеб батилин, аххириссеб нухалълъ цо хъалиянгIаги бухIун лълъикIилан. ХIалиццаго гIадин, бахъанила херасс кисинисса къватIибе тамахьоги хилиги, кьуранила цо хъалиян. Огьогьой! ГьечIила кодоб цIагIелги сакIги! Щиб гьабилеб? Мурадалдеги щвечIогойищ хвелев? Хьул къотIанила херассул. Щванила маркIачIумехх. Бихьанила гьассда доба рикIкIада кунчIулеб-ссунеб цо цIа. Вохханила херав, гьаранила гьесс васакIода дове цIа босизе айилан. Векеранила вас цIадухъе, векеранила. ВачIанила цо сагIаталдассан, цIадул хIенехIги хъатиниб лъун. ГIажаиблъи гьабунила херасс, гьикъанила, кингIагийин гьессда, хъатинибги лъун, цIадул хIенехI гьанибе щвезегIан босизе кIвараб. - ДахIадада, квер бухIунгутIизе, дицца хъатинибе цин сали бана, цинги гьелда тIад лъуна цIа рекIараб тIорччол кесек, – ан абунила разиго васасс. КIудадацца берал данде рачанила. БетIер кIибикIанила. Цинги гьессул гьурмаде гьими рехханила. Цо лълъидеххунали вуссарав гIадин, гьесс абунила: - Дида гьаб гIумруялда гIемераб жо малълъана гIадамаз, гIемераб жо дидагоги лъана. Цинги киданиги ракIалде кколароан ххарадуниб щуго сон барав гьитIинав васассги дарс кьелилан. 59. Ххарахьибго бугеб тIенкел, тIукъбиго чIвачIеб гIала. 60. Ххарж гьабе, тIаде бачIунелда рекъон, хур босе, ресалда рекъон. 61. Ххарж гьабичIого, ххайир щолареб. 62. Ххаридаги лълъедаги лълъикIлъизабизе кIолареб унти букIунареб. 63. ХхарилI къверкъ бихьунилан, къвекIаб цIцIум лIутулареб. 64. Ххасалидасса гурелила хIинкъизе кколел, ххасалихълъиялдассайила. 65. Ххасалил бакъалдаги божуге, тушманассул велъиялдаги божуге. 66. Ххасалил кьогIлъи бихьичIессда ихдалил гьуинлъи лъалареб. 67. Ххасалил лълъикIлъи ххинаб ратIлицца борцунеб. 68. Ххасалил ратIлие риидал ургъе, роол хIалтIуе ххасало ургъе. 69. Ххасалил ххинлъиялдаги божуге, хханассул чучлъиялдаги божуге. 70. Ххасало гьабураб гьор кунеб бече. 71. Ххасало гIазу бачIони, риидал цIцIад балареб. 72. Ххасало мегIер бацIие те. 73. Ххасало мегIер те, риидал гIор те. 74. Ххасало хьихьизе – лъарагIазе, риидал къинлъаризе – магIарулазе (накIкIазул хIакъалълъулI). 75. Ххасало хIажалъулеб риидалго балагье. 76. Ххасало цIакъав нилIерлъаги, риидал цIакъав чиярлъаги. 77. Ххасел ун – их, рии ун – ххасалихълъи. 78. Ххасел ххинаб бугони, их квачараб бачIунеб. 79. Ххасел чIчIовулI цIцIад бани, цIцIани къинлъулI гIазу балеб. 80. Ххаселалълъ ххасалил гIамал гьабураб лълъикIаб, рииялълъ роол гIамал гьабураб лълъикIаб. 81. Ххаселги ихги цоцалълъа рахъиялълъул гIаламатал, гIадилазул гьурал, ихги рииги цоцалълъа рахъиялълъул гIаламатал, ххалат рахъарал цIцIадал. 82. Ххаслихъе бечедав ихдал мискинлъулев. 83. Ххаслихъе дагIнида гьаб гIи лъилилан гьикъидал, жиндир бугилан абурабила. Ихдал гьикъидал, бетIергьанчияссул бугилан абурабила. 84. Ххаслихълъиялде къараб меххалълъ никIкIиццаги цIакъ хIанчIулеб. 85. ХхатIа кколарев чи вукIунарев 86. Ххвалчада гурхIел гьечIеб, гулида берал гьечIел. 87. Ххвалчада нахъа гьелда рекъараб гъежги къваригIунебила. Ххунздерил хханасс ссверухъ ругел росабазул гIадамазда кIуди-кIудиял магъалаби лъолел рукIун руго. Цо-цояз инкар гьабулеб букIун буго магъало кьезе. ЦIакъго хханассда данде чIчIун вукIун вуго Балахьунисса ГIадалавилан абулев бахIарчи. Гьесс росдал гIадамаздаги абулеб букIун буго хханассе магъало кьезе кколарилан. Гьединал чагIи хханассги, щиб хIила-макру ургъунги, тIагIинарулел рукIун руго. Чанги хIал бихьун буго ГIадалав тIагIинавизеги, мурадалдени щун гьечIо. ХIукму кканила ГІадалав гьоболлъухъ ахIизе, цо кинаб бугониги багьанаги батун, гьев чIвазе. ВачIанила ГIадалав ахIаралълъуве. Хханасс гьев кIудияб хIурматалда къабул гьавунила. Квана-гьекъолев вукIарав ГIадалассда къеда ригъарал жал шуршулел рихьанила. Щаклъанила жиндиего цо хIила-рекIкI гьабизехъин букIиналда. ХъващтIан тIадеги вахъун, ххвалчада кверги лъун, ГIадалав рукъ бакьулI чIчIун вуго. Хханасс гьессда абун буго дур ххвалчадул цIакълъийин, киссайин гьеб щвараб. БичIчIанила ГIадалассда хханасс жив ххвалчадасса ватIа гьавизехъин вукIин. ЦIцIан лъалинисса ххвалченги бахъун, гIебеде гьебги битIун, гьесс хханассда абунила - - Ххвалчада нахъа гьалда рекъараб гъежги къваригIуна! 88. Ххвалчадасса бергьарабги – хIила, тункIидасса гIужилабги – хIила. 89. Ххвалчадул балалда бусен тIамурав, 90. ТуманкIул кIалалда макьу бухьарав. 91. Ххвалчадул къвакIиялдасса къалмил тамахлъи бергьунеб. 92. Ххвалчадул лебаллъиялда кьурул борххалъи лъалареб. 93. Ххвалчацца биххизабичIеб бо ххарбицца биххизабурабила. 94. Ххвалчацца къотIичIеб мацIцIалълъ къотIулеб. 95. Ххвалчацца къотIичIеб носоцца къотIулареб. 96. Ххвалчацца къотIулареб квер – гьудуллъи. 97. Ххвалчацца тIутI чIварав ЧIалдасса ГІусман. 98. Ххвалчен рекIараб борче, кьалда мунго бергьунеб, рагIи битIараб бице, мун кидаго къолареб. 99. Ххеххго нахъе вахъине кколелълъув гIодов чIчIоге. 100. Ххер гьечIеб магIарда гIи хьихьулареб, рак чIвачIеб гъотIода пихъ бижулареб. 101. Ххер тIогьиллъулеб, тIад саву ккедал, лъимадул рекIел тIегь бортулеб, эбел хведал. 102. ХхерчIчIегIер, чIарххалат. 103. Ххеххаб гважуцца беццаб когIо гьабулебила. 104. Ххеххаб гIор ралъдахъе щоларебила. 105. Ххеххаб цIцIад ххеххго къотIулеб. 106. Ххеххго бачIунеб, кватIун унеб жойила къварилъи. 107. Ххеххго гIуцIцIараб ххеххго биххулебила. 108. Ххеххго рекIараб цIа ххеххго ссунеб. 109. Ххеххдари гIайиб буго, гIодой виччай рецц буго. 110. Ххеххлъуге, мутагIилум, ххеххлъуге! Дуе яси щвана, дие кваси щвана. Кици буго ццебегоссеб гIадаталда ххурххараб. БакIалълъул гIадат букIун буго гьоболассе рекIелгъеялълъе гьессда асскIой яс толеб, гьоболги гьелдеххун ххиянатаб бералдалъун валагьулареб. Нагагь гьоболассда хIалихьатаб жо ракIалде ккани, гьессие квешлъи-квекIенги гьабулеб. Цо хIалихьатав мутагIилумасс ясалдеххун гIадаталда рекъолареб бербалагьи гьабун буго. Гьеб бихьарай ясалълъул эбел къадарав гьоболассул бахъун гIодоб лъураб тIимугъ къунцIизе лIугьун йиго. КъвачIа гIадин тIимугъ гьабун батараб меххалълъ, гьобол виххун, ххеххдарун вуго. Ясалълъул эбелалълъги гьессда гьадал рагIаби абун руго. 111. ХхинкI босарасс тIор босе. 112. ХхинкIазде – щвартIиххалат, хуриве – рагIадххалат. 113. ХхинкIилI хьвайи гьечIони, богIое гIей гьечIеб. 114. Ххиял букIанила хераб гIанкIудал Ханал гьарилилан, къинлъарилилан. 115. Ххиял хIорлъугеги, сапар бигъунгеги. 116. Ххиянатав гьудулассдасса дудего ругьунаб гьойго лълъикIаб. 117. Ххиянатчи чияда божуларев. 118. Ххонжрое лълъикIаб бакI – лъалиниб, цIадуе лълъикIаб бакI – гъансситоялълъуб. 119. Ххонжрол ругъун сахлъулебила, мацIцIил ругъун сахлъуларебила. 120. Ххузе гуребила ражи букIунеб, ччузейила. 121. Ххулжил гIаг багьаравгун гIагарлъиги барщулеб. 122. ХхуличIони, кIал бацIцIалъулареб, чуричIони, черхх бацIцIалъулареб. 123. Ххун гьан гуреб, къинлъун хоно гуреб. 124. Ххунздерил гIадат хвани, гIандалазул балъ холеб. (Ххунздерил гIадат гIандалазул балъалда бащадаб). 125. Ххунзахъ тIалъиялде цIцIад балаго, ТIелекье бакъ щвани, Ххунзахъе цIцIер щолеб. 126. Ххунздерил мугIрузда ругел буртузул хIихIидиялълъ гьанир ругел гIулби хIорлъизаризе бегьараб меххалълъ, анссадерил гьабзазул хIапиялълъ ГIарахъмагIарда ругел гIиял щайила хьихьизе бегьуларел? 127. ХхунчIруз седараб хьаг, хIацIцIуцца седараб тIалъел. 128. Ххухх кодобе босани, куй гIодобе биччазе кколеб. 129. Ххухх-бурутI хьихьаразул кIал нахул цIурабила, бессдал лъимал хьихьаразул ракI ццидал цIурабила. 130. Хханжу тIагIине бокьани, тIепун ххинкIал гьарейила, квас тIагIине бокьани, буртаби ругIейила. 131. Ххвелал гьаруге, дандеясс дурго ххулжал гьаризе гурин. 132. Ххунги ччунги – кIиябго цадахъ букIунареб. 133. Ххунги ччунги – цоязе, бацIцIа-бакине – цогиязе.

  • xh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЧI z 1. ЧIагого хварав. 2. ЧIаго вугеб меххалълъ дуниялго кIкIвинейилан лIугьуневила къарум, хабалIги мусру кIкIунев ватулевила. Хварав чиясс мусру кIкIвин кигIан релъилессеб жо бугониги, умумузул гьадинаб кици-бицен буго, Къарумасс мусру кIкIвинги битIараб жойила, гьессул бетIер къотIун хIатIааххада лъезегIан, ххадур цун холел гIадамазул раххасс къотIунгутIиги битIараб жойила. 3. ЧIагого хун вачIинегIан, хвечIого ракьулI вукъиго лълъикI. 4. ЧIагоязе гьимуларев, хваразухъ гIодуларев. 5. ЧIагоязул пикру гьабуни, хваралI вуго, хваразул пикру гьабуни, Багъдадалда вуго. 6. ЧIагоял хунилан, хварал рахъунарел. НекIо, бухIараб хвел ккараб меххалълъ, эбелалълъ, яццалълъ, цо-цо лълъадиялълъ роол гьалулеб бакъул къоялълъги, къан рачелги борчун, къехь ретIунаан, буртинадул хьитал тIасса рахъулароан. ГIемераб меххалълъ, яги гIумруялъго чIчIегIер балаан. Бихьиназ ххалатаб заманалълъ мегеж толаан. Бертин-тоялдасса рикIкIад чIчIолаан. ГIадат чуч таразде «гIин кьурун рехханила аз гIагарав чиянги абулаан. 1885–1887 соназда букIараб Хъарсалълъул рагъда эменги чІван, бессдаллъун ххутIарал гIиссинал лъимал эбелалълъ гIезарун руго. ЦIцIикIкIарав васги гIужде вахун, гьессие лълъади ячунеб меххалълъ, бертин гьабиялда гIайиб чIван, рагъда хварассул яццалълъ гьал рагIаби абун руго, Зурмил къири буго къоролалълъуб, КъотIун араб бетIер бачIун лъаларо! Къолол двари буго бессдалазулълъуб, Галмие лъурав мун вуссун лъаларо! ХIакъикъаталдаги, гIурусазул рахъги ккун, магIарулав-рагъулав жидеда данде вагъизе вачIиналда ццин бахъарал турказ гьессул бетIер къотIун букIун буго. 7. ЧIалгIаде хьвадулеб гьойда я гьецIцIо речIчIула, я тIил кьабула. 8. ЧIалгIарав гьудул гьитIинабго налъукье ккезе гьаве. 9. ЧIалгIен тун, пикру цIцIани, цIцIан битIаралде ккола. 10. ЧIалу хIобоцца ккола, гIадан кваницца ккола. 11. ЧIамун кьураб жоялълъул гьуинлъи букIунаро. 12. ЧIам-чIам гьечIеб дам-дам. 13. ЧIам-чIам гьечIелълъуб дам-дамги букIунареб. 14. ЧIанагIан кIанцIизе кколилан абулебила гIанкIкIицца. 15. ЧIанда хIаллъани, хIалтIи дагьлъула. 16. ЧIахъаги гIагарлъи, ретIел ретIине кколареб, квен кьезе кколареб, къваригIараб къоялълъ батулеб. 17. ЧIахъаги ункъо бер, бахъаги кIиго бер! Гьеб буго рорчIухъабазул хIакъалълъулI. «ВорчIухъан цо вугони, – ян абулебила бацIицца, – гьесс кIиябго бер жиб бачIунеб рахъалдасса нахъе босуларила. ВорчIухъан кIиго вугони, гьел, цоцазде руссун, гаргадулила, жиндие ссанагIат кколила, гьезул ункъо берги тохх гьабун, гIиялълъе борчIизе». 18. ЧIахIил бусен тедал, гIакъил лIугьарав. 19. ЧIвазе бокьани, гIайиб ссундаго чIвазе бегьулеб. Эменги васги унел рукIанила, ццебе къотIун хIамагун, сапаралълъ. Щванила гьел цо росулIе. Росдал годекIаниссан унаго, гьезда рагIанила гIадамаз жидедего гIайиб гьабулеб, балагьейила цо, саламатаб хIама бугила ццебе къотIун, цоявгIаги тIадги рекIинчIого! РосулIа къватIире лIугьараб меххалълъ, инссуцца васассда абунила - гьадара годекIанир рукIарал чагIаз нилIеде гIайиб гьабунила, тIадги рекIинчIого, чIобогояб хIама ццебе къотIунилан. Вилълъайила, дир вас, мун хIамида рекIайила, жив лъелго вилълъинила. Вас хIамида рекIанила, эмен ххаду-ххадув вилълъанила. Гьедин унаго, гьел щванила цоги росулIе. Саламги кьун, годекIаниссан къотIун унел рукIанила гьел. Гьел ццересса рорчIилалдего, годекIанир рукIарал чагIаз абулеб рагIанила, балагьейила цо гIолохъанчияссул намус гьечIолъи, херав чиги лъелго вилълъинавун, живго хIамида рекIун вугила. РосулIа къватIире лIугьаралго, васасс инссуда абунила, эменин, гьадал годекIанир рукIарал чагIаз нилIеде гIайиб гьабунин, мун лъелго, дун хIамида рекIунилан. РачIайила дун лъелго, мун рекIун рилълъине. Вас рещтIанила, хIамида эмен рекIанила. Гьедин унаго, щванила цоги росулIе. ГодекIанир ратарал гIадамазе саламги кьун, унел рукIанила гьал. Гьеб меххалдаги рагIанила гьазда, балагьейин кIудияв чияссул яхI гьечIолъиялълъухъ! КвергIанассеб лъимерги гIодоссан билълъинабун, живго вугила хIамида рекIун! РосулIа къватIире лIугьингун, васассги инссуццаги хIукму гьабунила хIамида кIиялго рекIине. Гьедин рекIун унел рукIарал гьал щванила цоги росулIе. Ратарал гIадамазе саламги кьун, годекIан къотIун унел рукIанила. Гьанжеги рагIанила гьезда гIадамаз абулеб, балагьейила, гьагъал чагIазул гурхIел гьечIолъи! Цо хIамида саламатав кIиго чи вугила рекIун! РосулIа къватIире лIугьингун, инссуццаги васассги хIукму гьабунила, кIиялго лIугьун, хIамаги баччун, рилълъине. Гьедин унаго, гьел щванила цоги росулIе. ГIадамазе саламги кьун, годекIаниссан унел рукIанила гьал. Гьазда рагIанила гьенир рукIараз абулеб - «Гьал чагIазул ахIмакълъи бихьулищ? КIиязго баччун хIамагун, лъелго унел руго!» Гьеб меххалда инссуцца васассда абунила - - Балагьея, дир вас, чIвазе бокьани, гIадамаз гIайиб ссундаго чIвалеб буго. 20. ЧIван гурони гъунареб пихъ чIван гъинабизе ккола. 21. ЧIван хвейги гIид буго гIолохъабазе, гIалам урхъараб цIцIар нахъе бугони. 22. ЧIимигIаб бакIалдасанила кварги тIолеб. 23. ЧIобого бакъ щвараб гIела, гIадада ххасел араб гIела. 24. ЧIобого вачIарав чи чIобого уна. 25. ЧIобого кьолеб жо букIунареб, боцIцIи босун, Аллагь вачIунарев. 26. ЧIобого щвараб гьагIу гьацIцIудасса гьуинаб. 27. ЧIобогояб бетIералълъ боххдузе гIазаб кьола. 28. ЧIобогояб ботIрое цIураб кисаялълъ кумек гьабулареб. 29. ЧIобогояб кини кIибикIулареб. 30. ЧIобогояб къвачIил къвахьи кIудияб, чIобогояб ботIрол рецц-бакъ кIудияб. 31. ЧIобогояб чванта гьудулассеги бокьулареб. 32. ЧIагого хвел босуге, хвечIого мусру баге. 33. ЧIобогояб бетIер – хIатIазе гIазаб. 34. ЧIухIи хIебтилI букIунеб. 35. ЧIухIи хIелкие те, хIинкъи гIанкIие те. 36. ЧIурканлъиялълъул цIцIар къваригIарав вакъварав ГIиса гIадин. ГIисае бокьун букIун буго, я ХIажимурадил гIадаб бахIарчилъиялълъул, ялъуни Буртинаялдасса Гъайирбегил гIадаб бакьулIа чIурканлъиялълъул цIцIар босизе. ХIужимурадил гIадаб цIцIарги бигьаго щолеб жо батичIого, ГIисацца жигар бахъун буго рачлицца чехь данде къазабизе. ГIисал гьеб захIматалълъул хIассил ккун буго гIадамаз жиндаго вакъварав ГIисайилан тIокIцIцIар лъейги аваданав мадугьаласс жиндего гьал кочIол рагIаби рекъезариги, “Лъимал ругей къоролай гIакъиласс ячинаро, ГIакълу бугеб цIцIуяб жо ГIисаеги инаро”. 37. ЧIухIараб хIелеко, хIарщулI къан, холеб. 38. ЧIухIарав хIакимассдассаги цIунаги, хIулараб тIагъуралдассаги цIунаги, цIцIуяб бугъидассаги цIунаги. 39. ЧIухIарав хIакъирлъула, хIалимав кIодолъула. 40. ЧIухIарав чияссда цадахъ рекIун иналдасса гIадатав чиги ваччун инго лълъикI. 41. ЧIухIи бичун босизе кколареб. 42. ЧIухIуге, чIчIегIераб ракьалдайин мун лъезе вугев. 43. ЧIухIи хIатIикье кколеб, бахIарчилъи тIад кколеб. 44. ЧIухIиялълъги вакъиялълъгийила КъурбангIали хварав.

  • chh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЦI ` 1. ЦIа бакаралълъуве кIкIвелун, кIкIуй баккаралълъуве гьелун. 2. ЦIа босизе арай гьолокьей россассе арайила. 3. ЦIа гьечIеб кIкIуйги кIкIуй гьечIеб цIаги букIунареб. 4. ЦIа гьечIелълъуб кIкIуй букIунареб, лълъим гьечIелълъуб хьуцIцI букIунареб. 5. ЦIа рокъоб ккурай, бакъ рагъида ккурай. 6. ЦIа ссвараб цунтуралда кан бакизе кIоларо. 7. ЦIаги лълъимги асскIоб чIчIоларо, гьекъолдухъанассул чвантиниб гIарац чIчIоларо. 8. ЦIаги лълъимги гIадин рукIунге. 9. ЦIаго бакилалде, кIкIуй бахъарал. 10. ЦIагIел – дур, сакI – дир. 11. ЦIадаб бачIеб чед кунев Бигищ гIадин. Гъассда кIиябго рахъ кьеризабураб, жиги цIадаб бачIеб (тIаде цIа хъван бежизабичIеб) чедги корол хIамаялда базабун, цо гьитIинаб къваригIелалълъ къватIие ун йиго Бигищил чIчIужу. Гьагъаб параялда рокъове щварав Бигищ чед квине лIугьун вуго. - Вуйгь! Дуцца гьабулеб жо щиб, Бигищ, цIадаб бачIеб чед кунев! – ан чIчIужуялълъе кIудияб кеп щвараб меххалълъ, Бигищицца абун буго: - Рецц Аллагьассе буго! Унго, гьединищ иш букIараб! Валлагь-биллагь, дида ккун букIана дунго унтун ватилилан! 12. ЦIадабе бегьараб квер бухIичIого ххутIуларо. 13. ЦIадабе нарт тIолареб. 14. ЦIадул кутак лълъецца чIвалеб, загьрудал кутак даруялълъ чIвалеб, хIалхъублъиялълъул кутак ссунццаниги чIвалареб. 15. ЦIадулгун маххссара те, лълъадалгун божилъи те. 16. ЦIакъ ворххани, тIепула, тIепун чIчIани, ворххула. 17. ЦIакъ къвакIани, бекула, тамахлъани, гьетIула. 18. ЦIакъ лъала гIонкIкIода мугьал щолеб бакI. 19. ЦIакъ хIапулелълъ хIанчIулареб, ккун чIчIоларесс кьабулареб. 20. ЦIакъав чини вугоанила мун, дагьав гIантав гьечIевани. 21. ЦIакъалдасса цIакъаб жо камулареб. 22. ЦIакъго витIаравлъунги вукIунгейила, цIакъго гIакъилавлъунги вукIунгейила. 23. ЦIакъго гьаракь борххунги кIалъаге, кето гIадин, мимидизеги мимидуге 24. ЦIакъго гIакъилассул гьудулзаби дагьалила. 25. ЦIакъго гIемераб бечелъи бокьарав бугелдассаги ватIалъизе бегьула. 26. ЦIакъго рецц бокьулев ххадув беццлъизеги бегьулев, гIинкълъизеги бегьулев. 27. ЦIакъго рокьиялълъила катицца жиндирго тIанчIи кваналел. 28. ЦIакъго хIинкъарассда асскIореги къаларелила щайтIаби, ракI кьвагьун, гьев хвезе гурилан; цIакъав бахIарчияссда асскIореги къаларелила, жидеего зарал гьабиялда хIинкъун. 29. ЦIакъго чIухIарав чIвалев, унти баххчарав холев. 30. ЦIакъго эххеде ворххарав гIодов квеш речIчIулев. 31. ЦIаялде гIагараб гIарахъ бухIичIого ххутIулареб. 32. ЦIаялълъила цIа бакулеб. 33. ЦIел хIалтIи цIецца гурони гьабулареб. 34. ЦІеххезе чи щвечІони, хІохьода цІеххонги, цІеххечІого тогейила. 35. ЦIибаккараб босе, басралъун хвараб нахъе реххе. 36. ЦIиданделъарал росс-лълъади ругеб рокъобе илбис лIугьунаребила, базаралдеги бачун, бичилебилан хIинкъун. 37. ЦIида бацIцIунилан бацIицца бацIил гIамал толареб. 38. ЦIидалълъго раса-цIцIалкIу магIидайила. 39. ЦIиял башмакъазул къуцIи берцинаб, цIияй бахIаралълъул гIеретI гвангъараб. 40. ЦIияб жо лъималазда лъала, умумузда басриябги лълъикI лъала, цIиябги бихьула. 41. ЦIияб нух – цIияб рукъ. 42. ЦIияб ретIел ретIараб басрияб щайтIан. 43. ЦIиябги босе, басриялълъулги къимат гьабе. 44. ЦIиябищ, гьанже гьабурабищ? 45. ЦIиялълъ басрияб хисулеб, басиялълъ оц хисулеб. 46. ЦIубанагIан тIор гIодобе къулула, бечелъанагIан чи эххеде валагьула. 47. ЦIул бугони, гIащтIи камиларо. 48. ЦIулада бараххщун, цIа ссвине тарай, ЦIцIилцIцIида бараххщун, рукъ чорок тарай. 49. ЦIулада рекIараб цIа ссунеб, тIулида рекIараб цIа ссунареб. 50. ЦIулада цIа рекIани, бухIун лIугIула, ссуна, рекIеда рекIараб цIа кидаго ссунаро. 51. ЦIулакьодул гъотIода микьир бижуларо. 52. ЦIулалълъ рекъолареб канал ноцIцI гIадав, къадалI рекъолареб гьецIцIо гIадинав. 53. ЦIуна-къай гьечIезул къоял, чияда ццере квералги ккун, унелила. 54. ЦIуна-къай Ираналълъулгун даран-базаралдасса бергьунебила. 55. ЦIуна-къай къарумлъи гуро. 56. ЦIуна-къараб жоялълъе къо камулареб. 57. ЦIураб гIертIинибе лълъим тIолареб. 58. ЦIураб рагIинибе лълъимги тIоге, лълъеда накъищги бахъуге. 59. ЦIуралълъухъ цIураб кьолеб жойила гIорто. 60. ЦIураххинкIазулцин лълъикI гурила бо.

  • kx | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЧIчI Z 1. ЧIчIараб гьабицца гIатI ххунареб. 2. ЧIчIараб лълъим махIцинчIого ххутIуларо. 3. ЧIчIарассул малъ кIутIулареб, кIалъаларев мекъи кколарев. 4. ЧIара-хьарав гурев бихьинчи – ритIучIил хIацIцIу. 5. ЧIчIарацца – рахь, чуруцца – нах. 6. ЧIчIегIераб букIа, хъахIаб букIа, гьой буго гьой. 7. ЧIчIегIераб гIакдалги букIунеб хъахIаб рахь. 8. ЧIчIегIераб щакъиялъин хъахIаб кагъат басунеб, чIчIегIераб тIурччиялълъин багIармесед биунеб. 9. ЧIчIегIералда чIчIегIерабилан абизе, хъахIалда хъахIабилан абизейин кIал букIунеб. 10. ЧIчIегIергIоралълъ бачIараб БагIаргIоралълъ гъанкъулеб. 11. ЧIчIикIизегIан гьуинавги вукIунге, туйзегIан кьогIавги вукIунге. 12. ЧIчIинкIилассдасса гIабдалго лълъикI. 13. ЧIчIинкIилассе дагьаб лъаниги гIолеб, гIалимчияссе дагьабги лъазе бокьулеб. 14. ЧIчIужу абилалде, цо духъгоги валагье. 15. ЧIчIужу бараххщарай лълъикIай, росс саххаватав лълъикIав. 16. ЧIчIужу берцинай йикIин россассе рецц гуро. 17. ЧIчIужу гIакъилай яче, гIадалаб гIанкIуялълъ цIцIодораб хоно гьабулареб. 18. ЧIчIужу егани, рукъ бегулеб. 19. ЧIчIужу ецце, ячун къого сон бараб меххалълъ. 20. ЧIчIужу инжит гьаюлев чи – Аллагьассул тушман, ятим къварид гьавулев чи – Аллагьассулги ххалкъалълъулги тушман. 21. ЧIчIужу квешассул мегеж ххеххго хъахIлъулеб. 22. ЧIчIужу къокъай йигониги, нодо чIвазегIан гIодове къулунги, гIакълу дандбай. 23. ЧIчIужу лълъикIаб рукъ лъазе годекIанире ралагье. 24. ЧIчIужу лълъикIав росс – лълъикIав, чIчIужу квешав росс – квешав. ЦоцалI лълъикIав кIиго ваццги гьезул хъизаналги рукIун руго. Цояв вацц жиндирго чIчIужуялда ццеве веццарун вуго жал гIадал цоцалI гьуинал ваццалго ругодаян. Лълъил гьунарилан дуда гьеб кколебилан гьикъун буго чIчIужуялълъ. Нижер гьунархха! – ян жаваб кьун буго россасс. Ун руго къоял. Гьазул бакIалде вачIун вуго гъов цояв ваццассул гьитIинав вас. Гьассул чIчIужуялълъ жиндирго васассеги ваццассул васассеги кьун буго цо-цо гIанкIудул хоно. Азул вас гъове араб меххалълъ, дандияй нусалълъги кьун буго кIиявго васассе цо-цо хоно. Гьанже ццебеккун ханал кьурай гаргадун йиго жиндирго ваццассда - «Балай бихьизе, дицца дур ваццассул васассе хоно кIудияб кьуна, нилIерассего гьитIинаб кьуна. Дур ваццассул чIчIужуялълъин абуни, жиндирассего кIудияб кьун буго!». Ваццассда захIмалъун буго жиндир васассе гьитIинаб хоно кьей. Гьелдалъун кIиявго ваццассда гьоркьоб кьал ккун буго. «Ле, лълъикIав чи!» – ян абун буго чIчIужуялълъ жиндирго россассда, – ГIанкIудул ханил кIодолъи-гьитIинлъиялда тIад вагъулев чийищ лълъикIав чиян веццарулев вукIарав? Россассул лълъикIлъи-квешлъи чIчIужуялда барабин букIунеб!». 25. ЧIчIужу мадугьалассул лълъикIайила берцинай. 26. ЧIчIужу рекъарай нусги щвечIо, вас рекъараб чуги щвечIо. 27. ЧIчIужу хварав къасси гIодулевила, оц хварав къад гIодулевила. 28. ЧIчIужу хвей – цо балагь, чIчIужуйилан цоги балагь, тIаде ккей – кIиго балагь. 29. ЧIчIужу чияр берцинай лълъикI, чу нилIерго берцинаб лълъикI. 30. ЧIчIужу ячани, чIчIужу щола, россассе ани, росс щола. 31. ЧIчIужу ячарай гIолареб, чIчIужуялълъе россги къваригIунев, руссунги къваригIунеб. 32. ЧIчIужу яче, чияе инчIей, чу босе, чияца рекIинчIеб. 33. ЧIчIужу ячин – моцIцIил роххел, гIумруялълъул ургъел. 34. ЧIчIужу ячине – херав, хвезе – бахIарав. 35. ЧIчIужу ячунге чадил мучари гьабулей. 36. ЧIчIужу ячунелълъулги чу босулелълъулги, бералги къанщун, Аллагьассде божилъи гьабе. 37. ЧIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна, щагIил рекелги йикIуна. 38. ЧIчIужугун вагъани, чехь тIеренлъула, росугун вагъани, рукъ нахъе ккола. 39. ЧIчIужугIадан йигила цIцIорол тIагIел, чIинкъани рукъи базе бегьулареб. 40. ЧIчIужугIаданалдасса къадарав бихьинчиги вукIунев, бихьинчияссдасса цIакъай чIчIужугIаданги ятулей. 41. ЧIчIужугIаданалълъул гIакълу квенчIчIелтIа букIунебила, гьей тIаде яхъингун, бортунги унебила. 42. ЧIчIужугIаданалълъухъ ралагьизейила берал рижун ругел. 43. ЧIчIужуквешил гьобол воххун унарев. 44. ЧIчIужуялда гьикъейила, гIаксса гьабейила. Кици буго буссурбабазул ххалкъазда гьоркьоб цIакъго тIибитIараб. Бихьиназдассаги лълъикIал руччаби, руччабаздассаги къадарал бихьинал рукIунеллъи, ххассго руччаби рукъалълъул магIишаталълъул цIакъал гIуцIцIарухъаби рукIинги лъалаго, магIарулаз гьаб кици битIухъ гьабулел маргьабиги рицуна: Россасс чIчIужуялда гьикъарабила жив гъоркье кIанцIилищилан. ЧIчIужуялълъ абурабила кIанцIугейилан. КIанцIаравила росс – бекарабила бохх. Цинги, битIун гьел къоязда жаниб, рагъ-кьалги багъарун, росдал киналго бихьинал тIагIаралила. НилIер рекъав багьадур, “Куличияссул хIелеко гIадин”, росдалго руччабазда гьоркьов цохIо ххутIаравила. Цо чиясс дибирассда гьикъарабила руччабаз малълъараб жо гьабизе бегьулищилан. Дибирасс чIван къотIун жаваб кьурабила бегьуларилан. Валлагь, дибир, жив витIун ккун вугилан абурабила суал кьурасс, чIчIужу йикIанила дуе дагьаб нахги ханалги росейилан. Жинцца росичIила. «ВахI! – ан бетIер хъассанила дибирасс. – ГIакъилай чIчIужуялълъ малълъараб цо-цо жояли гьабизе бегьулеб букIараб». 45. ЧIчIужуялда гIадин, росс лъаларевила. 46. ЧIчIужуялда кьабулебги якьадалда щолеб. 47. ЧIчIужуялда рихарав чияссулгун гьалмагълъи гьабуге. 48. ЧIчIужуялда щакдари – россассул гIайиб. Росс щакдаризави – лълъил гIайиб? 49. ЧIчIужуялълъ алжан гьедун босулебила. 50. ЧIчIужуялълъ россассда абурабила мегеж ххалатав чияссда гIакълу букIунарилан рагIанилан. Россасс чIчIужуялдаги абурабила, мегеж гIакълу гьечIезул ххалатаб букIунебани, руччабазул мугжул, хIатIикье ккун, тIутIулел рукIинаанилан. 51. ЧIчIужуялълъ россассда гьикъарабила гьан киб баххчилебилан. Россасс абурабила гьанада цIцIар хъван букIунарин, цIцIоко тIагIинабеян. 52. ЧIчIужуялълъ россассул хIал лъабго нухалълъ бихьулебила - ячиндал, лъимер гьабидал, херлъидал. 53. ЧIчIужуялълъ росслъи гьабиги – дурго гIайиб, васасс эменлъи гьабиги – дурго гIайиб. 54. ЧIчIужуялълъе бокьани, хIамилги бихьинчи гьавулевила. 55. ЧIчIужуялълъул багьаяв гьечIев россги вукIуневила, анцIго россассул багьаяй чIчIужуги йикIунейила. 56. ЧIчIужуялълъул рокъов вукIинегIан, гамаги тIерхьун, тIад босун ххутIараб хъорщодаго лълъикI. Гамаги ралъдалIе тIерхьун ун ххутIараб цо хъорщода лъедолел рукIун руго эменги васги. Гьанже нилIедасса кIудияб къварилъиялда щивниги вугодаян гьикъун буго васасс инссуда. НилIедасса кIудияб къварилъиялда вугин чIчIужуялълъул рокъов вугев россилан абун буго инссуцца васассда. 57. ЧIчIужуялълъ рукъ къачIайдал, рацIцIалъигIаги россассги цIунизе кколеб. 58. ЧIчIужуялълъе зар кьолев, йокьулелълъе ракI кьолев. 59. ЧIчIужуялълъе я росс къваригIуневила, я руссун къваригIунебила. 60. ЧIчIужуялълъукьа хIинкъи – рукъалълъе ххайир. 61. ЧIчIужуялълъул бечелъи – сахлъи. 62. ЧIчIужуялълъул лълъикIлъи – хIалрекъей. 63. ЧIчIужуялълъул надалда иту бахъизе ккани, хвана хIалтIи. 64. ЧIчIужуялълъухъ тараб мегеж – чIчIужу ялагьизе лъураб тIагъур. 65. ЧIчIун букIараб хIамицца хIунссун мегIер бегуларо. 66. ЧIчIун вукIинегIан, гважи буххулев вукIинги лълъикI.

  • u | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Р r 1. Рагъ ккараб меххалълъ гуребила ярагъ хIадурулеб, рагъ ккелалдейила. 2. Рагъалдасса рекъел лълъикIаб. 3. Рагъалълъ вас гьавуларо, гьавурав чIван гурони. 4. Рагъалълъ къед баларо, бараб биххун гурони. 5. Рагъда щив бергьаравали, рагъ лIугIидал лъала, чIчIужуялълъ васищ гьавилевали, къинлъидал лъала. 6. Рагъде вахъиналде мунгоги лъай, дурго тушманассул къуватги лъай. 7. Рагъде лIутизе гурелила унел, рагъизейила. КIийидеги рекъав цо рагъухъан рагъде унев вукIанила. Данде ккарасс гьессда абунила, - Ле талихIкъад! ЛIутизе ккани, дуцца щиб гьабилеб? Бищун ццеве ххадув гъурасс чIван реххила гури мун! - Рагъде лIутизе гуро унел, рагъизеги бергьинеги уна! – ян жаваб кьунила рекъав рагъухъанасс. 8. Рагъидаго – бакъ, къотIнобго – мажгит. 9. Рагъулебги гIадат, рекъолебги гIадат. 10. Рагъун рихьунила белехь рекъарал. 11. Рагьуге ракI, рагьани, къаге. 12. РагьумахIугIан бегизе захIматаб мегIер гьечIеб. 13. РагIабаз гуребила калам берцин гьабулеб, магIнаялълъила. 14. РагIал бахъараб, ракьан бахъичIеб каламалдасса цIунаги. 15. РагIал бахъун, хур бекье, ракьан бахъун, бокь хъващтIе. 16. РагIал гьечIеб майдан букIунареб. 17. РагIалалдасса ракьан лълъикIаб. 18. РагIанщинаб бицаравги – гьерссихъан, бихьанщинаб бицаравги – мацIцIихъан. 19. РагIанщинаб бицинги мунагьила. 20. РагIанщинаб бицине гуребила кIал букIунеб. 21. РагIарав нусго нугIассдасса бихьарав цо нугIго лълъикIавила. 22. РагIаралдасса бихьараб битIараб. 23. РагIи абилалде лъабцIцIул ботIрониб ссверизабейила. 24. РагIи бадибе лълъикIаб, тIил мугъалде лълъикIаб. 25. РагIи бакI бихьунила абизе кколеб. 26. РагIи баччуларесс зар баччулеб. 27. РагIи бице, бакI бихьун, ургъел бикье, чи вихьун. 28. РагIи бице, магIна бугеб, кици тIаме, гогьар бугеб. 29. РагIи бугеб рукъалдасса магIу бугеб рукъго лълъикIаб. 30. РагIи гьабизе – нус, нису кваназе – яс. 31. РагIи гьабуларесс боцIцIи хьихьуларо. 32. РагIи гьечIони, кечI букIунареб, гамачI гьечIони, къед букIунареб. 33. РагIи гьорое биччалев Гьорол МухIума. 34. РагIи гьуинаб бицун, гьоло кунев бетIеркъотI! 35. РагIи гьуинассул гьудул гIемерав, кIал хъачIассул тушман гIемерав. 36. РагIи гIакъил – гIакълугьечI, гьури кIодо – пишагьечI. 37. РагIи гIемерав вакъарав, бугIа гIемерав гIорцIцIарав. 38. РагIи гIемерав «гIакъил» гIадамазда чIалгIуна, чIалгIаде гаргадулев ххалкъалдаго рихуна. 39. РагIи жаниб лъоларессда бицинегIан, квенчIчIел цIун къватIибе байго лълъикIила балъголъиялълъе. 40. РагIи къокъаб лълъикIабила, гIарщ ххалатаб лълъикIабила. 41. РагIи къокъал, къадар ххалатал ратаги. 42. РагIи кьара буго – кьей хIалакъ буго. 43. РагIи кьварараб бице, кьабизе ккани, лIута. 44. РагIи кьогейила, кьуни тIубазабейила. 45. РагIи кьучIчIав чи чодаги лъалев. 46. РагIи лъалев – гьакида, гьакил бетIергьан – гIодов. 47. РагIи лъалев гIабдалассдасса мацIцI лъаларев цIцIодор лълъикIав. 48. РагIи рагIуде бачIуна, гIор кьодукье бачIуна. 49. РагIи – рекIел кIул. 50. РагIи тIагIуна, тIолалго гIадамал хвараб меххалълъ, гIайиб тIагIуна, щивниги тIад кIалъачIого тараб меххалълъ. 51. РагIи ургъун бице, гали борцун тIаме. 52. РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме. 53. РагIи ххалат, ххабар къокъ. 54. РагIи хвани, чи холев. 55. РагIи хварав чи – живго хварав чи. 56. РагIи холев чияссулгун гьудуллъиги гьабуге, холарев реххунги тоге. 57. РагIи-ххочI ххалатассул ххиянат камулареб. 58. РагIи ххалеб хадиро, ххараб цIцIалкIулеб цIцIалкIу (ххараб чIчIикIулеб чIукIна). 59. РагIи хIалакъаб бице, гьан кьарияб кванай. 60. РагIи – ццебессан, тIил – нахъассан. 61. РагIи цIцIалкIулеб цIцIалкIу, цIцIад кколареб буртина. 62. РагIи цIеххоге, хIалтIи цIеххе. 63. РагIи цIцIикIкIиналдасса чIагIа цIцIекIлъиго лълъикIила. 64. РагIи чол багьаяв – живго чахъдал багьаяв. 65. РагIи чIчIедал – гIакъил, кьалда бергьиндал – багьадур. 66. РагIиги кьун, тIубачIого теялдасса, рагIи кьечIого тезе бигьаябила. 67. РагIизе бокьулареб жо рагIулареб. 68. РагIиялълъ гIадан лъала, гIамал бихьун реххссола. 69. РагIуд гIорцIцIиги тIоход вакъиги – цого жо. 70. РагIуд ракъаги, богIод гIорцIцIаги. 71. РагIуда божуге, хIалтIуда божа. 72. РагIуда куркьбал рукIунел (ца таралълъ мегIер толеб). 73. РагIуда ххадуб рагIийила. 74. РагIуда хIатIал гъурай, хIалтIуде нуцIцIа къарай. 75. РагIудаги хIалтIудаги гьоркьоб къол нухила. 76. РагIуе рагIи камулареб, яргъие ярагъ камулареб. 77. РагIукъавщинав гIинкъав вукIунарев. 78. РагIул гугьар гьечIин, гьурал жалго те. 79. РагIул гIомо гьабуге, гIабдалгун щагъадуге. 80. РагIул гIомоялълъул гIарщал гьаруге. 81. РагIул камитал кварасс керен ххачазе ккараб. 82. РагIул квешлъи – ххалалъи, ххарбил квешлъи – гIемерлъи. 83. РагIул кумек боцIцIул кумекалдасса кIудияб. 84. РагIул магIна бичIчIуларесс битIараб гьерессилъун, гьересси битIараблъун гьабулебила. 85. РагIул магIна бичIчIулеб, бакI бихьун. 86. РагIулI лълъикIлъиги букIунебила, гIажалги батулебила. 87. РагIулIе загьру жубаге. 88. РагIухъ ралагьуге, хIалтIухъ ралагье. 89. РагIуцца бахъулареб хъала букIунаребила. 90. РагIуцца гIадан лъала, даруялълъ тоххтир лъала. 91. РагIуцца лIукъулел, рагIуцца сахги гьарулел. 92. РагIуцца рагIи бахъула, чIагIдацца гIуп бахъула. 93. РагIуцца хур беэн гьабуларо, гьури-мучалълъ чIараларо. 94. Радал багIар – къинаб, къасси багIар – хIораб. 95. Радал барщани, къасси рекъолел нилIералго лълъикIила. 96. Радал бицараб къоркъое арай, къасси бицараб борхьие арай. 97. Радал вахъаравги гьитIинго чIчIужу ячаравги нахъа воххулев. 98. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб. Журай къинлъулеб заманалда цо-цо ягъзинав вехьасс, радалго вахъун, жиндирго лемагалда чияр цIцIуяб кьегIер босизабулеб букIун буго, чияралда жиндирго бихьинаб кьегIер босизабулеб букIун буго. Гьединаб хъублъиялда тIад бижараб гьаб кици жакъа хIалтIизабула радал вахъарассул хIалтIи лIугьуна, иш битIун ккола абураб магIнаялда. 99. Радал вахъарассул кьегIер цIцIуяб, ццудун вахъарассул сахлъи лълъикIаб. 100. Радал вахъинчIессе къо къваридаб. 101. Радал вахъудасса гIадин къаркъалаги букIунаребила, чи ховудасса гIадин ракIги букIунаребила. 102. Радал вачIарав гьобол ххеххго унев. (Гьаниб гьобол ккола тIабигIат. Умумузул аби буго радал рачIарал накIкIал ххеххго нахъе унилан). 103. Радал кваначIого, къватIивеги вахъунге, къватIул ххарбал росун, рокъовеги вачIунге. 104. Радал къалъизегIан бугони щиб къолол магъало, къалъудасса нахъе бугони щиб росдал кIодолъи. 105. Радал - къалъизегIан къулгъу цIцIалулев, къалъудасса нахъе чагъир гьекъолев. 106. Радал - къалъизегIан къуръан цIцIалулев, къалъудасса нахъе хIамул рикъулев. 107. Радал – къватIиве, къасси – жаниве. 108. Радал – рохьдолIе, къасси – бокьобе. 109. Радал роцIцIун, къалъуда кьерхун. 110. Радал яхъаралълъул балъ тIокIаб. 111. Радалги къассиги квен россассул бугони, къадеквенгIаги чIчIужуялълъулги букIине кколеб. 112. Радалго гьабураб хIалтIи лълъикIаб, гьитIинго ячарай чIчIужу лълъикIай. 113. Радалисса мацIцIицца чанги чи мукIурлъулев, мацIцIида ракI рекъарав бакъ ун ххадусса лъалев. 114. Радалквен дуццаго кванай, къадеквен гьалмагъгун цадахъ кванай, къассиквен тушманассе кье. 115. Ражи мискинчияссул дандежойила. 116. Ражи тIагIиндал тIураб цIцIамулIин гIадав. – Ражи хху - ххун, ххинкIал квин дуццаги те, Ххарабат! – ХхинкIазда гIужал райи дуцаги те, хIалихьат! 117. Ражи цIцIоролеб моцIцIалълъ ЦIцIолода рохьовеги унге, цIцIани къинлъулI мундерил ахакьеги унге. 118. РажидулI анкьго дару букIунеб. 119. Разилъи гьечIого яс ригьнаде кьейги кIудияб мунагьила. 120. Разияб къоялълъ гIурусазул гьатIанкъо гIадав, пашманаб къоялълъ жугьутIазул шаматкъо гIадав (ВитIани – гьатIан, гьетIани – шамат). 121. Рак бараб хуриве Аллагь валагьунев, бечедаб рокъое яс ялагьулей. 122. Рак баралълъуб хIалухъин хIалигIараб букIуна. 123. Рак гьечIого, бокь бичуге, бекьичIого хур бичуге. 124. Рак хIаллъанагIан, хIалухъин гьарзалъулеб, кици гIемерлъанагIан, калам берцинлъулеб. 125. Рак чIвачIеб хуралдассаги цIунагийила, хур гьечIеб рукъалдассаги цIунагийила. 126. Рак чIвачIони, ракьалълъ пайда кьолареб, хъулухъ гьабичIони, ахикь пихъ бижулареб. 127. Раква гьетIунилан, гьобо хисулареб, гьобо бекунилан, раква хисулареб. 128. РакугохI хисунилан хъабхъал чIахIалъиларо. 129. Ракъдадаги вукIун гуребила ччугIа кколеб. 130. Ракъдада лIугьараб хIор ххеххгого къунебила. 131. Ракъи – хьул, кIвахI – ссвак. 132. Ракъугеги, гIорцIцIугеги, рахакь хваги. ПатихIа. 133. Ракъуда нич гьечIеб, бечелъиялълъе гIей гьечIеб. 134. Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани, рагIи гьуинлъула. 135. Ракъул къали кIутIугеги, къохьол тIажу ретIунгеги, чиякълъун чи ххутIугеги. 136. Ракъусоналълъ месед учузаб. 137. Ракъусоналълъ руцIцIун чIчIарал, гIорцIцIунсоналълъ релъанхъарал магIарулал. Ракъусоналълъ, хъабиниб бетIерги къан, годекIаниссан унеб гьойда щивго велъичIевила. Хур бачIараб соналълъ, гьебги ракIалде щун, киналго релъаралила. 138. Ракъусоналълъ эбел якъуцца хварайила, вас, чохьодасса ун, хваравила. 139. Ракь бижилалде, рак бижарабила, гIолохъанчи вижилалде, гьекъолеб жо бижарабила. 140. Ракь бухъани, месед батулебила, рагIи бухъани, гIажал батулебила. ВукIун вуго цо бечедав чи. БукIун буго гьессул кIудияб ахги гIатIидаб пастIан-къоноги. Кидаго гьесс кIиявго васассда абулеб букIун буго - “РакьулI месед бугебхха, дир лъимал, рагIулI гIажал бугеб. Ворехха, нужецца ракь гIемер бухъе, рагIи дагьабги бухъуге!” – ян. Жинцца ракьулI баххчараб щибниги жо гьечIого, инссуцца кидаго нилIеда гьадал рагIаби гIемер абилароанилан ракIалдеги ккун, кIиявго ваццасс ракь гIемер бухъулеб букIун буго. Месед-гIарац жинда-жинда батилародаян, цоцаздасса балъгоги хъирщадулел рукIун руго. КъотIун буго пайдаяб жо батиялдасса хьул. Реххун тун буго ваццаз ракь, ракьалълъ гьалги тун руго. Заманалдассан гьитIинав ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги кIудияв ваццассул хIелеко хъазлъун бихьун буго. КIудияв ваццассдаги гьессул чIчIужуялдаги ккун буго гъозул хъаз варанийилан. КIудияссухъе щун батилин дагьабниги меседилан гьитIинав, гьитIинаб гIонкIкIоцца гуккун ватилин живилан кIудияв, цоцаздеги шакдарун, рагIи бухъизе лIугьун руго. Руччабазги риччан руго рагIул ххалатал раххссал. Инссуцца меседилан ссунде абулеб букIарабали бичIчIичIел лъималазда рагIулI гIажал цIакъго кIудияб батун буго. 141. Ракь кинаб букIаниги, гьелълъ гурони нилI хьихьуларел. 142. Ракьа гьечIеб гьан букIунареб. 143. Ракьа гьечIеб гьанги хIе гьечIеб гьоцIцIоги букIунареб. 144. Ракьалда бихьичIониги, хIарам зобалда бихьулеб. 145. Ракьалдасса бер гIорцIцIулареб, гIарац тIассан чваххулареб. 146. Ракь-ракьалълъул гIадат батIияб, гIадамазул ххассиятги батIияб. 147. Ракьа бугони, гьан камиларо. 148. Ракьа бугониги гIолебила ГIандисса чое. 149. Ракьалдассан рижарал нилI ракьалде тIад руссуна. 150. Ракьалда тIадалдасса ххиянатчияссе ракьул чохьонибго лълъикIила. 151. Ракьул бетIергьан вуго ракь хIалтIизабурав чи. 152. Ракьул гIанкIкI ракьул гьойцца гурони кколареб. 153. РакьулI баххчаниги балагьулебила гьунаралълъ къватIибе нух. 154. РакьулIе ккараб мугь тIирщичIого ххутIулареб. 155. РакьулIе регьел – ракьулIан тIорщел. 156. РакьулIе рехханиги, месед холареб, хабалIе аниги, бахIарчи холарев. 157. Ракьуцца кваназавизе бокьарасс ракьги кваназабе. 158. РакI бахIарлъунилан, черхх цIилъуларо, Чорххол лугбузул гьан гур-гурун ххадуб, Горбол щекI цIцIабуцIцIун, мугъ битIуларо, Мугъзал гьод къулараб къо бачIун ххадуб. 159. РакI бащалъуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, чехь бащалъуларессулгун гьалмагълъиги гьабуге. 160. РакI бакъвани – Закил рукъ, ццим бахъани – Ххизрил рукъ. 161. РакI бащалъун квараб гурга лълъикIабила, мекъсса руссун квараб чадидасса. 162. РакI беццлъиялдасса бер беццлъи лълъикIаб. 163. РакI бечедассул рукъ мискинаб. 164. РакI битIизегIан, мацIцI битIулареб. 165. РакI бихьуларев гьудулассдасса берал рихьулев тущман лълъикIав. 166. РакI гурхIун, асскIобе бачараб бурутI, ццим бахъун, бачахъизе ккарабила. 167. РакI гIедегIарассе нух ххалатаб. 168. РакI квегъиялдасса черхх квегъи бигьаябила. 169. РакI къварилъи – херлъиялълъул бащалъи. 170. РакI кьерхарассе дунялги кьерлъун букIунеб. 171. РакI рагьуларессулгун гьудуллъиги гьабуге, сапар хIехьолареб хIамагун нухдаги унге. 172. РакI херлъичIогойилан, къаркъала херлъичIого букIунареб. 173. РакI унтун гIодани, беццаб бадиссаги магIу баккулеб. 174. РакI херлъугеги, хоб билугеги. 175. РакI чIчIараб жо – гIайлан чед. 176. РакI щваралълъубе хIетIги щун. 177. РакI щулияссул черххги щулияб, ракI тамахассул черххги тамахаб. 178. РакIал гIатIидалълъуб бакIги гIатIидаб. 179. РакIалда бугеб жо бицинчIогойила нухъа чIчIегIерлъараб. 180. РакIалда бугебщинаб гьурщизе кколареб. 181. РакIалда гьечIеб мугъалда нахъа батугеги. 182. РакIалда къараб къватIибе реххичIого ххутIулареб. 183. РакIалдасса ххеххаб жоги гьечIеб, ххеххго хисулеб жоги гьечIеб. 184. РакIалълъ борце, гIакълуялълъ къотIе. 185. РакIалълъ пикру гьабичIони, канал бераздаги щибниги бихьулареб. 186. РакIалълъ хвел гьарулей, кIалалълъ сахлъи гьарулей. 187. РакIа-рахари гьечIезул къо, къваригIараб жо балагьулаго, унебила. 188. Ралъад гъваридабгIаги, гьелълъулги тIину бугеб, мегIер борххатабгIаги, гьелълъулги бетIер бугеб. 189. Ралъад лълъецца гIорцIцIулареб, боцIцIи гIун, чи холарев. 190. Ралъдадаги гел лъе, гIемер бугилан исрап гьабуге. 191. Ралъдаеги щуб къваригIунеб, щубаеги бакъ къваригIунеб (Ралъдаеги – щуб, щубаеги – бакъ). 192. Ралъдал карачелалда рекIинчIони, гьоцIцIо щоларо. 193. Ралъдал лълъималълъеги пасалъи бегьуларебила. 194. Ралъдал лълъим цIцIикIкIуна тIаде рачIунел гIораздалъун, тIадчияссул лъай цIцIикIкIуна чияцца бицунелълъухъ гIинтIамиялдалъун. 195. Ралъдал тIину гьечIеб, гIорцIмадул тIинчI гьечIеб. 196. РалъдалIе бохх биччан паххрулъарай мун, Ралъад къундай бугеб, мун къулун йигин. Меседил мали чIван зодой яхарай, Молол гIучI бекундай, гIодой чIван йигин. 197. РалъдалIе лълъимги баччуге, рохьобе тIилги босуге. 198. РалъдалIе реххараб рукIкIада ххадувги унге, хварав чияссде гIайибги реххуге. 199. Рас бижанагIанила гIункIкI бугьунеб, бечелъанагIанила чи бараххщулев. 200. Рас ххалалъунилан хханасс мун ячинаро. 201. Рас хIеренаб бихьунила хIанчIицца руз бетIулеб. 202. РатIа – биххаро, бохх – гIуцIцIаро. 203. Рател гьечIеб хIалтIи – меххтулареб чIагIа. 204. РатIалги щоларого, щигатги гIоларого. 205. РатIаялълъ гьоркьоблъи тIезабулеб, боххалълъ гIуцIцIулеб. 206. РатIлид вуцIцIарассул хIурмат кIудияб, тIагъур хIуларассухъ гIин тIамулареб. 207. РатIлие эххетарав тIоххое бегьуларев. 208. РатIлил исбагьилъи – гьарзалъи, чорххол исбагьилъи - ххалалъи. 209. РатIлихъ балагьун – дандчIвай, ххарбихъ балагьун – тIовитIи. 210. РатIлицца чийилан, чухъа ретIарав, чоцца багьадуран, ябу рекIарав. 211. РатIлицца – чи, чоцца – багьадур. 212. Рахакь хIебтIарав хIал ккедал къватIив чIвалев. 213. Рахал рикIкIунев гьечIев чиясс квеш вугилан абуге. 214. Рахараб гъамассги буцIцIараб кIалги – кIиябго бечедаб жо. 215. Рахен гьечIеб гIор букIунареб, нух гьечIеб мегIер букIунареб. 216. Рахен гьечIеб кьуру гьечIеб, рагIал гьечIеб авлахъ гьечIеб. 217. РахъдалI бугониги, чиниги лъала, чурулI бугониги, меседги лъала. 218. Рахь баккулареб гIакдае чури кьоге. 219. Рахь гьечIеб гIакдацца гIартилI мал бала. 220. Рахь гIемер унеб бугилан, гIункIкI къан цIцIурай, гIадада жо теларилан, хвараб гIака бечIчIарай. 221. Рахь кьолареб гIакдае чури кьоге, пайда бахунареб жоялълъе ххарж гьабуге. 222. Рахь хахулелълъул бече хIалакъаб. 223. РахьдалI рас ххеххго бихьулеб. 224. Рахь-нах бокьарасс гIака лълъикI хьихье (ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран). 225. РахIат гьечIеб хIалтIудассаги цIунаги, хIалтIи гьечIеб рахIаталдассаги цIунаги. – РахIат, хIажи, рахIат! – ан абурабила гIарабиясс варани цогидазулалда ххадуб гъезабеян абурав хIеж борххулев магIарулассда. РахIат букIуна дие, дир вараниялълъул бетIер цогидазулалда бащалъараб меххалълъ! – ан жаваб кьурабила магIарулассги. РахIатаб гIумру бокьани, дуццаго чияеги гьабуге налъи, чияда дуегоги гьабуге. РахIатал гьарзалъани, гIакълу гьечIев чIухIула, Балагьал тIаде щвани, ххеххгого къварилъула. 226. РахIаталълъе гIей гьечIеб, рокьуе гIурхъи гьечIеб. 227. РахIаталълъе гIей гьечIебила, боцIцIи гIун, гIаданги хвечIевила. 228. РахIаталълъе гIей гьечIилан, ГIакулицца бусен борлIарабила. 229. РахIатгун – хIалихьалъи, захIматгун – бахIарчилъи. 230. РацIцIалъи гьабулей гурейила яцIцIадай, рацIцIалъи цIунулейила. 231. РацIцIалъи – сахлъиялълъул бетIер, чороклъи – унтул гьудул. 232. РацIцIа-ракъалъи гьабизеялдасса цIунизе лъазе ккола. 233. РацIцIа-ракъалъи гьабулелълъуб гуребила букIунеб, цIунулелълъубила. 234. Рачараз лълъудби хьихьаги, гьарураз лъимал хьихьаги. 235. Рачелалълъ чехь къарав, чоцца гьан къарав. 236. Рачиде баче чаран. 237. Рач-рачаги, а-аги, ирга дидеги щваги. 238. Раччлиде гIи аралълъуссан хIатIида гIицIцIго ине ккаги. 239. Раччи бачче черххалда рекъараб, квен кванай чехьалда рекъараб. 240. РаччулI хIама къинлъугеги, хIалтIулI лълъади къинлъугеги. 241. РачIчI бухьун, хIама чIчIолареб (ХIамил рачIчI бухьун чIчIолареб). 242. РачIчI къотIун, борохь къелIе биччаге. 243. РачIчI кIудияб лIугьинейилан, дегIен хьихьун букIарабила, лIурдул кIудиял лIугьун, чехь бихъизе ккарабила. 244. РачIчI ххалатаб гьойги хьихьуге, гьод ххалатаб чуги босуге. 245. РачIчIалдасса чIухIараб хIелеко гIадин. 246. РачIен гьечIеб рукъ – охх унеб гьобо. 247. Ращалъи гьабунагIан, гьуинлъи (гьудуллъи) цIцIикIкIунеб. 248. Ращалъиялълъул асслу – ритIухълъи. 249. Регьел гIуралълъубе щуб гIолеб. 250. Регьел хIалалъуб чед кIудияб, чи хIалалълъуб хIалтIи кIудияб. 251. Регьелги ххинлъиги гIедалила гIодобе бортараб мугь тIирщалеб. 252. РегIараб меххалълъ гуребила кумек гьабулеб, къваригIараб меххалълъила. 253. РегIараб меххалълъ гьабилилан гIаданлъиги тоге, херлъараб меххалълъ гьабилилан динги тоге. 254. РегIараб меххалълъ гьабилилан кумекги тоге, щвараб меххалълъ бецIилилан налъиги тоге. 255. «РегIуларо», «щоларо» гIилалъун рикIкIунаро. 256. РегIун гIумру аги, хIехьезе гIакълу кьеги. 257. Рекъав чияссул рагIад къокъаб букIуна. 258. Рекъараб гIамал ккурав гIадамазе вокьула. 259. Рекъараб рехъалълъ хъумур речIчIулареб. 260. Рекъасс къвал цIурабила, къокъасс магь баччарабила. 261. Рекъел бугила масслихIатчагIазул иш, цин ХIаригабурлъи бегейила. Яс уней йиго васассда ххадуй лIутун. Гьезие хIинкъи буго ахIуд бахъун бачIараб ясалълъул гIагарлъиялълъ жал чIваялълъул. Ясалълъ васассда абулеб буго, унго, умумул нилIеда тIассагIаги лIугьинародай, гьел нилIгун рекъезарулев чиго вукIинародайилан. Васасс ясалда абун буго, цин хIинкъи бугеб бакIалдасса рорчIилин, маслихIаталълъе чи камиларев ватилилан. Кициялълъул магIна буго - «Цин хIинкъиялдасса цIуне, ххадуссеб ххадуб гьабе», – ян абураб. 262. РекъечIеб бицарассда бокьулареб рагIулеб, ххвалчадул ругънадасса рагIул ругъун унтулеб. 263. РекъечIелълъуб кIал гъурай, кIваричIелълъуб бер гъурай. 264. Рекъолареб ганчIицца къед ссурукъ гьабула. 265. Рекъон кванай, къецц бан хIалтIе. 266. Рекъон хIалтIаразул хIалтIи гIемераб, рекъон ахIаразул бакъан рекъараб. 267. Рекъон чIчIикIаре. Жибго гьитIинаб «гIамал кIудияб» кIиго рагIиялдассан гIуцIцIараб гьаб кициялълъул гьайбатлъиги берцинлъиги! Вихьизе гьитIинав, гьунар кIудияв чияссде магIарулаз абула тIаде вугевгIанассев ракьулIеги вугев чийилан. НилI жиндасса чIухIизе бегьулеб гьаб кIиго рагIиялълъул кьалбал гъваридал руго. Гьалълъ бицуна цолъиялълъулI гуч букIиналълъулги, росдал газа кьурда рекIиналълъулги, кIиго бетIерги рекъани, ункъо кверги хIалтIани, рукъ бечелъиялълъул, инсаният рекъон хIалтIанагIан, кинабго рахъ ццебетIеялълъулги, бищунго инсанассе хIажатаб, рекIее рахIат бугеб, хIинкъи гьечIеб гIумруялълъулги. Гьелда тIад бижана - «Рекъон хIалтIанагIан цадахъаб магIишат бечедаб», – ан абураб цIияб кициги. 268. РекIараб чуялда кьурдарав дун, кьолочIеб гIорцIмада рекIарав мун. 269. РекIаралълъув рещтIаги, борчаралълъуб бичаги. 270. РекIарассда лъелав велъуларев. 271. РекIаразул бода гьабизе кIолареб гIакъилассул кIалалда гьабизе кIолеб. 272. РекIарассухъ ралагьун, рекIа, рещтIарассухъ ралагьун, рещтIа. 273. РекIеда балареб гьуриялдасса гьури-бакъ чIвалареб чIчIегIер ракьулI лълъикI! 274. РекIеда бараб хIапаро гIадав чи. 275. РекIеда кIулал рарав, кIалдиб килас кьабурав. 276. РекIеда тIатIи рекIарав мун, тIулида нацIцI барав дун. 277. РекIеда тIатIи рекIарав хIариколоссессда хIатIикь цIа бакарав кIахъияв вичIчIиларо. 278. РекIедасса рекIеде – кьо. 279. РекIее бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколев. 280. РекIее бокьараб жо – чорххое мархIам. 281. РекIел бер балагьичIони, бералда канлъи бихьулареб. 282. РекIел бечелъиялда боцIцIул бечелъи бащалъуларебила. 283. РекIел гIадлу биххугеги, чорххол гIамал хисугеги. 284. РекIел гIин гIенеккичIони, гIиналда рагIи рагIулареб. 285. РекIел къварилъиялълъ гьакълиде цIцIалел, дагIба-къеццалълъ кьалде ахIулел. 286. РекIел пашманлъи хъамулеб гьури – хIалтIи. 287. РекIел хIуби – чехь, чохьол хIуби – чед. 288. РекIелI бугеб лъалареб, лъороб бугеб бихьулареб. 289. РекIелI бугеб меххалълъ нилI балъголъиялълъул хханзабийила, цабзаздасса борчIани, нилI гьелълъул лагъзалила. 290. РекIелI бугеб хъублъи гьурмадаги бихьулебила. 291. РекIелI цоги ккун, кIалалълъ батIияб бицунге. 292. РекIелI цIунараб цо хIарп лълъикIабила кагътида цIунараб нусго рагIиялдасса. 293. РекIелI чаран бугессе чинаридул тIилги тIассан ккараб ярагъила. 294. РекIелIа рокьи кIалдисса гIус гIадин бахъуларо. 295. РекIелIан бачIараб рагIи гурони, рекIелIе унареб. 296. РекIиндал Аллагь кIочон тарав, рещтIиндал чу кIочон тарав. 297. РекIиндал чу лъалеб, вилълъиндал рекъав лъалев. 298. РекIине лъараб гIадин, рекIараб чол квелълъ кквезеги лъа. 299. РекIинеги лъа, рещтIинеги лъа. 300. РекIинчIого чу лъалареб, чиякълъичIого чи лъаларев. 301. РекIун бихьун, чу босе, лъун бихьун, кьили босе. 302. РелъанагIан гIодизе кколел. 303. Релъедал макьилI щиб бихьулареб, вокьуларев чиясс щиб бицунареб? 304. Релъи букIунебила бачIарабги бачIине гьабурабги. 305. Релъи гIемералълъуб талихI гIемераб. 306. Релълъаразда релълъаралила росс-лълъади данде чIвалел. 307. Релълъаралда релълъарабила ратIлида рукъи балеб. 308. Релълъаралда релълъарабила рохьдолI хIайванги данделъулеб. 309. «Рес бугезул гъáлалълъ», – ан гьагай бикаялълъ месед гъалазда гьоркьоб хьухьун букIарабила. 310. Рес гьечIеб сон - савуд бухIараб дуниял. 311. Рес къотIидал вагъуларев чи вукIунарев, ручнибе тIамидал багъулареб гьой букIунареб. 312. Рес къотIидал хIинкъаравги къвакIулев. 313. Рес мекъаб гъветI камураб рохь букIунареб, гIабдал камураб росу букIунареб. 314. Рес рекъаравгIан чи – къарумав, мискинавгIан чи – саххаватав. 315. Рес щибила Чакарил, мочол хурий ятидал. 316. Ресги бугони, резги бугони, хъарбекIалда горал тIамизе бигьаяб жойила. 317. РетIел инжит гьабуни, ратIликълъиги бихьулеб, чед инжит гьабуни, чадикълъиги бихьулеб. 318. РетIел къадараб букIа абе, къамартIго чIчIа, мискинчи. 319. РетIел бихьун, къабул гьарулел, гIакълу бихьун, тIоритIулел. 320. РетIел бихьун – чи, чу бихьун – бахIарчи. 321. РетIел тIутIурассде гьабиги рортулел, тIагъур хIуларассда тIохIокги велъулев. 322. РетIел ххашав чияссде ххеххго рагIи реххуге, хъабчилI багьадур ватун, рекIекълизе бегьула. 323. РетIел цIидалъго цIуне, намус гьитIинго цIуне. 324. РетIел цIияб лълъикIаб, гьудул басрияв лълъикIав. 325. РетIине гурони къоги бачIинчIо, къойил ретIун хвараб дарайдул гурде! 326. РетIине камугеги, кваназе тIагIунгеги. 327. РетIине лъаларессе читери кьурав Аллагь, Чуризе лъаларессе мандари кьурав Аллагь. 328. Рехханщинаб чIор гIужда щолареб. 329. Реххаралълъуб тIенкел, тIамуралълъуб турут гIадин. 330. Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб бечелъи. Ххунздерил хханассулги гьидалъессулги бечелъи сабаблъун дагIба-къецц кканила. Жив бечедав вугилан ххан, гурила, жив бечедав вугилан гьидалIев чIчIанила. АхIанила хханасс гьидалIев Ххунзахъе, бихьанила гьессда жиндирго бугебщинаб гIарац-меседги гIарац-меседалълъул гьабураб къайиги. Жойидего гьабичIила гьидалIес гьеб бечелъи. Анила ххан ГьидалIе гьидалIессулги бечелъи бихьизе. ЦохIого цо цагъурги ссанкIалги цIураб ролI бугила гьессул, я гIарац гурила, я месед гурила. ГьидалIессул бечелъиялде бер-ракIго щвечIого, нахъ вуссанила ххунздерил хханги. Анила цо сон, анила кIиго сон, бачIанила Ххунзахъ тIалъиялдаго цIакъ хурукъаб сон. Хханасс, месед-гIарацги босун, гьакалги рачун, жиндирго гIадамал ритIанила ГьидалIе, ролI босизе. ГьидалIес, щибго жоги абичIого, хханассул месед-гIарац чури тIолеб росонибе банила, тIаде гьойги биччанила. Гьелълъ, чуриги чIчIикIун, месед-гIарац, цо мискъал камичIого, росол тIиналда ххутIанила. «Реххун гьойцца кунареб, вакъарассе къимат гьечIеб нужерго месед-гIарац нахъе босе», – ян абунила гьидалIесс. РачIарал гьакал цIун, ролIги битIанила ххунздерил хханассе. Гьанже бичIчIанила хханассда гьидалIесс живго щай бечедавлъун рикIкIуневали. 331. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила Мала Нассрудиницца, вараниялда куркьбал рижун ратичIелълъул. 332. Рецц Аллагьассе бугилан абурабила хIамицца, чIчIужугIаданлъун бижун батичIелълъул. 333. Рецц бокьуларев ххан вукIунаревила, ххарж бокьуларев нукар вукIунаревила. 334. Рецц бокьуларев чи къанагIатав, ришват босуларев хIаким дагьав. 335. Рецц гьабун гаргадиялълъ бецц гьарула, гIунгутIаби рициналълъ кантIизарула. 336. Реццалълъ бецц гьавизе вукIунгейила. 337. Реццалълъ гуревила чи гьавулев. Иццухъ дандчIванила лъабго чIчIужугIадан. ТIоццеессей лIугьанила хIаталдасса ун жиндирго вас веццизе. “Дир гIадав малълъарабги гьабулев, гьикъарабги бицунев вас росулIго гьечIо. Лълъицца киве витIаниги, инкар гьабичIого, уна, щиб тIад къаниги, тIубазабула”, – ян абунила гьелълъ. КIиабилелълъги байбихьанила жиндирго вас веццизе. “Валагь, дирги вуго цIакъав вас. ЧIахIиязул адабги гьабула гьесс, гIиссиназул хъатирги гьабула. Цо лълъиениги кумек гьабизе щвани, тIокIаб щибниги къваригIунаро дир дарманассе. Щиб гьабизе дун лIугьаниги, ццеве-ццеве кIанцIун, гьабула”, – ян бицанила гьелълъги. Лъабабилей, гьезухъги гIенеккун, юцIцIун чIчIанила. Гьеб кинабго рагIанила цо херассда. Гьессда ракIалде кканила гьей лъабабилей гIаданалълъул лъимерго батиларилан. Батаниги, гьеб батилин кIкIвахIалаб, хIалтIи рихараб, эбел-инссул адаб гьечIеб рижи. Руччабаз гIертIалги хъубиги лълъел цIунила. Цинги, гъажалда гIертIалги ран, кодор хъубиги ккун, годекIан къотIун, унел рукIанила. Гьенив ганчIида гIодов чIчIун вукIарав цо гьитIинав вас дой щибго жо абичIей гIаданалда асскIове векерун анила. “Дихъе кье, баба”, – янги абун, гьелълъухъа хъаба босанила. Реццарулел рукIарал руччабазул добго ганчIида гIодор чIчIун рукIарал лъималин абуни тIадецин рахъинчIила. Гьеб кинабго бихьарав херасс, бетIерги кIибикIун, абунила - “Реццалълъ гIадан гьавуларо, гIамалалълъ гурони”. 338. РечIчIани, къелIе унев, къани, хIоболIе унев. 339. РечIчIулев-речIчIулев вукIа, цояб щвечIони, цогияб щолеб. 340. Рещалъараб меххалълъ моцIцI тIасса бекула, барщараб меххалълъ бетIичIеб пихъ бортула. 341. РещтIине лъаларев рекIинавуге. 342. РещтIине чIеп гуреб, чIчIезе мокъ гуреб, билълъая, бачинин мунго бичизе. 343. Ригь чIухIарав гуревила бечедав, хур чIухIаравила. 344. Ригьда рега, ригьда рахъа, рузил гIамал жибго те. 345. Ригьин гуро бацIилги гьойдулги гIадаб рекъел, гьудуллъи гуро царалги нухлулассулги гIадаб божилъи. 346. Ригьин – реццалълъул, даран – рекIкIалълъул. 347. Ригьин чияргун лълъикIаб, чи нилIерго лълъикIав (ригьин чияргун гьабе, чи нилIерго ккве). 348. Ригьинги ригьги ургъун гьабе. 349. Ригьнадасса воххарав кидаго берталълъ вуго, ригьин-цIа бигъаразе даимаб гIазаб буго. 350. Ригьнисса гьурал унеб, гьоросса гурцIал унеб (ххасел бащалъиялълъул гIаламатал). 351. Риди гьаризе унесс хъаба баххчулеб. 352. Риди дарулъи лъалебани, нахъияссе щвелароанила. 353. Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман. 354. Рии аги, бугIа гIезе, ххасел аги, рагIи гIезе. 355. Рии кьарияб, кьин хIалакъаб. 356. Рии кьижун арассе ихдал мискинлъиялълъ макьу толареб. 357. Рии нахулаб бачIаги, ххасел бечедаб бачIаги. 358. Рии чIчIедал, хур бекьарав, ххасел чIчIедал, ххер бецарав. 359. Риида – тIингъилI, ххасало – чухъилI. 360. Риидал бакънал рачуней йикIарай ххасало кьурдулей йикIа. 361. Риидал бакъуд мугъ бухIичIони, ххасало чIагIдад чехь бухIуларо. 362. Риидал борохь бихьарав ххасало гIарщикьа хIинкъулевила. 363. Риидал гьарурал ганчIал кьеян абулебила ххасало гIачияз. 364. Риидал гьекичIони, ххасало гьунщуларел. 365. Риидал гIадалнах гьаличIони, ххасало хьаг гьалуларо. 366. Риидал гIодобе бегьараб квер чIобого бачIунареб. 367. Риидал гьабичIеб ххасало батулареб. 368. Риидал жиндие гIоло чIваян абулебила чоцца тIукъби, ххасало нужеего гIоло чIвайила. 369. Риидал кьижани, кьиндал гIака холеб. 370. Риидал кьижарай Кьара ГIашура, Кьиндал гIака холеб рагIичIищ дуда? 371. Риидал риди гьекъе, ххасало нах кванай. 372. Риидал тIимугъ босе, ххасало буртина босе. 373. Риидал – Ххалунчакар, ххасало – Гвангвачакар. 374. Риидал херабги босуге, ххасало хIалакъабги босуге. 375. Риидал хур бекье, ххасало кор баке. 376. Риидал хурив хва, ххасало рокъов хва. 377. Риидал хIалтIарав кьиндал кванала. 378. Риидал черхх берцин гьабула узданаб ретIелалълъ, ххасало – ххинаб ретIелалълъ. 379. Риидал чIарадичIони, ххасало гьороб жо букIунареб. 380. Риидала – Ххассбика, ххасало – къватIулбика. 381. Риидалил цого хур, ххасало гIазукь къараб, Ххасалил цого ссугъур, боххиссан ххер баккараб. 382. Рии-риидал – чIор-чIорол, ххаса-ххасало – гуд-гудучI. 383. Рикьи балеб къвачIинибе къали базе бегьуларо (рикьунибе къали чIехьолареб). 384. Рикьул гьарурал ххинкIал ригьда кунев алазан. 385. РикIкIада бугеб гIагарлъиялдасса асскIов вугев мадугьалго лълъикIила. 386. РикIкIада месед бугилан рагIани, асскIоре щвейдал пахь батулеб. 387. РикIкIада ругел гIагарал чагIи, унтун рагIилалде, хун ратула, хун рагIилалде, рукъун ратула. 388. РикIкIадасса квараб къалиялдасса гIагардасса квараб ссахI лълъикIаб. 389. РикIкIадассан йихьизе лълъикIай чияр яс асскIоре щун йихьизе жо гурей жо ятула. НекIо гIемериссел магIарул росабалI гIадат букIана абурай яс жиндирго абурассда йихьизе чIчIолареб. Тоххлъукье данде чIван, вас кIалъаниги, яс кIалъалароан. Чанги ячунаан бер чIван йихьичIейги. Гьелълъул хIассилалда гьадаб кициялълъ бицунеб жоги гIемер кколаан. РикIкIадассан гурони чияда рихьуларел бечедал чагIазул жанир тун цIунарал цо-цо ясал канлъукъал, рагIукъал ратулаан. 390. РикIкIаде боржараб гIумру къокъаб цIцIум. 391. РитIухълъи ххвалчадассаги рекIараб. 392. РитIухълъи цIунизелъун рухIалдаги бараххщуге. 393. РитIаралщинал рагIаби берцинал рукIунарел, берциналщинал рагIаби гьерессиялги рукIунарел. 394. РитIухълъи гъоркье, тIекълъи тIаде ккараб заманги букIунебила (Риди тIаде ккараб, тIорахь гъоркье ккарабги бачIунебила заман). 395. РитIухълъиялде нух ххалатаб. 396. РитIухълъиялълъе диван хIажалъуларо. 397. РитIухълъиялълъул нух гIатIидаб. 398. Рихараб ххоххоцца ххер гIемер кваналеб. 399. Рихханжоялълъул жо гIолареб, гургил чед лIугьунареб. 400. «Рихьдае Бичассул чагIилъун хIараз, Сунатабги гьабун, гьоркьоб тола парз». 401. Риццатазе – тIорахь, тIереназе – риди. 402. РицIцIил тIилада тIорччол бер гъурав вугониги, чоххтIо-чIинчIуялдаса къадараб тIагъур букIунареб. 403. Ришват босуларев хIаким дагьав, хIарам гьабуларев даранчи дагьав. 404. Рододасса нах буххарав, хвараб хIамидасса тIукъби рахъарав. 405. Рокъоб бугеб – къватIул лълъим, кватIиб бугеб – гьацIцIул лълъим. 406. Рокъоб гамачI къулчIчIизе кканиги, къватIиб лъазе тогейила. 407. Рокъоб гьой – къватIибги гьой, рокъоб бацI – къватIибги бацI. 408. Рокъоб как баларев Гогол ГIалицца, гамаялде вахун, жамагIат бана. Кицилъун лIугьарал гьал рагIабаз бицунеб буго ххалкъалда гьоркьор рукIарал жидеццаго какцин баларел, жамагIаталълъе динияб ццебехъанлъи гьабулел рукIарал гIадамазул. 409. Рокъоб къадру гьечIессул къватIибги букIунареб. 410. Рокъоб къвакъвадулеб, къватIиб къинлъулеб. 411. Рокъоб къир-къир бугони, дуниял къварилъула. 412. Рокъоб кьечIеб талихI рохьоб кьелищилан абурабила салтIасселълъ. 413. Рокъоб ххам бугони, ххалатаб гурде, ххараб жо бугони, чIахIиял ххинкIал. 414. Рокъоб чед бугессда чияр мацIцI лъаларо. 415. Рокъобго къулгIаги тун, къватIисса лълъим баччарай. 416. Рокъобе нух кидаго гIагараб. 417. Рокъов вукIун, хур босулеб, хурив вукIун, рукъ босулареб (хIажатаб ццебе босе, цогидаб ххадуб босе). 418. Рокъов гъалбацI – къватIив гIанкIкI. 419. Рокъов – дегIен, къватIив - цIцIе. 420. Рокъов цIцIогьор хваги, ЦIцIоров дибир хваги. 421. Рокъой йигеб меххалълъ инссул рукъ, рокъое юссиндал – чияр рукъ. Кициялълъ бицунеб буго, россассе кьурай яс тIад юссун ячIараб меххалълъ, гьелълъул къадру холилан, хъизаналълъе гьей йокьуларилан. 422. Рокъой йигей лълъадул «лълъикIлъи» батила, лълъимцин хъван гьечIо дур шарбалалда. 423. Рокъой лълъади йокьун, къватIий дун йокьун, Къвалакь гьудул йокьун, берал дий къвакун. 424. Рокъой чIчIужу – бакъги моцIцIги. 425. Рокьаразул такъсир – гьитIинаб мунагь, рихаразул ххатIа – кIудияб мунагь. 426. Рокьи басандичIони, хIалтIул хIур бахъунареб. 427. Рокьи бергьараб жо ккола, эбел-эменни рази гьариги инсанассул борч ккола. 428. Рокьи бикъарав цIцIогьор кколаро. 429. Рокьи бищунго ццидалаб цидулги кколебила. 430. Рокьи гьабизеги вас къваригIунев, Ярагъги борчарав, чуги рекIарав. Балай гьабизеги яс къваригIуней, ГIалххул чундузда гъорлI ритIучI гIадинай. 431. Рокьи гьечIеб черхх – чед гьечIеб таргьа. 432. Рокьи гьечIеб рекIелI ццин букIунаро. 433. Рокьи ккани, кочIохъан яхъуна, чехь бухIани, магIихъан яхъуна. 434. Рокьи ккаразе бусен носол балалдаги гIолебила. 435. Рокьи ккаразе нохъоги – кIалгIа. 436. Рокьи ккарай яс кьералълъ бицуна. 437. Рокьи ккечIей гIаданалда, росода нахъа чIчIун, квен гьабизе лъаларебила. 438. Рокьи ккечIого гьабураб ригьин – гьодораб. 439. Рокьи кьерилI букIунеб. 440. Рокьи, кьолбода гьикъун, гьабулареб, кьал, годекIаниб гьурщун, гьабулареб. 441. Рокьи лълъилго кколеб – рокьуе къвал къазе чи къваригIунев. Балай лълъилго бергьунеб – балай хIехьезеги вас къваригIунев. 442. Рокьи хIарамаб гьечIо, цохIоялълъухъ бугони. Гьекъел хIарамаб гьечIо, гьекъезе лъан, гьекъани. 443. Рокьи – цо, рещтIунеб бакI – кIиго. 444. Рокьиялда гьоркьоб кьалги букIунеб, Балаялда гьоркьоб кьогIлъиги кколеб. 445. Рокьое баге, гьанае бай. Кициялълъул магIна буго хIайваналълъе рагIи-ххер, гьелда гьан букIаго, кьара букIаго, бай, рокьоде ккун ххадуб хIайван кьара гьабизе захIмалъулилан абураб. 446. Рокьуе берцинлъи къваригIунареб, макьие къаданижо къваригIунареб. 446. Рокьуе малълъарухъан хIажалъуларевила. 447. Рокьул рачел къазе чи къваригIуна, Балагьи хIехьезе яхI къваригIуна. 448. Рокьул ццебехъан – маххссара, кьалул ццебехъан – квекIен, кьерхадул ццебехъан – гьури. 449. Рокьуцца ракьа биунеб, балаялълъ берзул нур унеб. 450. РолI бекьарас ролI лъилъулеб, муч бекьарасс муч лъилъулеб. 451. РолIуда гъорлI сусур гIадин вукIунгейила. 452. РолIул хурир ганщалги тун, ссанда ругел бачазе гIадлу гьабулел. 453. Роол къо ххасалил анкьида бащалъулебила. 454. Роол рукъ – буртина, рукъалълъул хΙуби – лълъади. 455. Роржунел жалазда гъорлI чIчIегIераб лачен гIадав. 456. Росс вокьуларей чIчIужуялда гирун бачIунеб гьорчоги гьессул гIайибалдалъун бачIунеб бугилан кколебила. 457. Росс гьавулейги – чIчIужу, росс чIвалейги – чIчIужу. 458. Росс гьечIей чIчIужу – къед биххараб рукъ. 459. Росс какулаго, рукъ кварай, гIака какулаго, нах кварай. 460. Росс квешлъани, лълъадуцца чияхъ рокьи гьабула. 461. Росс кIодо гьавулейги – чIчIужу, чIахIилIе реххулейги – чIчIужу. 462. Росс лълъикIай чIчIужу – лълъикIай, руссун лълъикIаб чу – лълъикIаб. 463. Росс реххулеб кIкIалги – лълъади, росс вахунеб щобги – лълъади. 464. Росс рихаралълъ абулебила жинда росс щакдарулилан, цIцIали рихарасс абулебила жив дибирассе вокьуларилан. 465. Росс хер гьавулейги – чIчIужу, бахIар гьавулейги – чIчIужу. ДахIаххенеро гIадин, гьабил рогIороялълъул бетIералда ххенолеб букIанила цо багIаргIеч. ХIалалав гьабигьан, гьелълъул бетIергьанчи цIеххезе, гьабирахъ чIван эххеде анила. Бищун ццебе батараб ахил бетIергьан – хъахIаб мегежалълъул херав чиясс абунила гIеч жиндир гурин, тIадеххун вугев кIудияв ваццассул батизе бегьулилан. ВитIулаго-витIулаго, гьабигьан тIаде кканила чIчIегIераб михъ-мегежалълъул гIолохъанчи – бищун кIудияв ваццассде. ГIечги гьессул ахикьа бортараб батанила. Гьабигьанасс цIакъ тамаша гьабулеб букIанила ваццазул гIумруялда. КигIан викIараниги, кодобе щвараб жоги букIинчIила. КIудияв ваццасс гьабигьан гьоболлъи гьабизе рокъове вачанила. ЧIчIужуялдаги абунила жидее цо лълъикIаб хъарпуз босун ячIайилан. БачIанила хъарпуз, россассни гьей, дагьабги лълъикIаб босун ячIа, дагьабги лълъикIаб босун ячIаян, лъабцIцIулго нахъюссинаюнила. Цинги, гьаб лълъикIаб бугилан ункъабилеб хъарпузги къотIун, гьабигьанассда гьадин бицанила. Хъарпуз жидер рокъоб цо гурони букIинчIила. ЧанцIцIул нахъ юссинаюниги, чIчIужуялълъ жиндир рагIи хвезабичIила. Гьединай чIчIужу йикIиналълъ жив херлъичIила. Руччабазул ссанагIат гьечIолъиялълъ, ххассго бищун гьитIинав ваццассул лълъадул квешлъиялълъ, жиндир гьитIинал ваццал гьагъадин херлъанила. 466. Россал ругез рокъоб бицунеб, къоролзабаз корохъ бицунеб. 467. Россасс гIатIада хIуччал хъвай – чIчIужуялълъул гIайиб, якьадалълъ царгъида кIулал рай – нусалълъул гIайиб. 468. Россасс лълъади хьихье, лълъецца гьобо ххене. 469. Россасс цIияй чIчIужу ячараб сордоялълъ, хварай чIчIужуялълъул бетIер горбодасса батIалъулебила. 470. Россассда лълъади лъабго къоялълъ юхIулейила, лълъадуда росс лъабго моцIцIалълъ вухIулевила. 471. Россассда рекъарабила лълъадул кIаз букIунеб. 472. Россассда ццим бахъани, чIчIужуялълъ лъимал руххулел, россассул ццим бахъани, чIчIужу юххулей. 473. Россассе индал – хIанкIич, хIорго йикIиндал – мокъокъ. 474. Россассе инегIан – эбел-инссул рукъ, тIад юссун ячIиндал – тушманасул рукъ. 475. Россассе инчIей яс ятагийин, чIчIужу ячинчIев вас ватагийилан гьарулебила гьардухъанасс. 476. Россассе инчIого, гIабдал лъаларей. 477. Россассе кьезе дир яс гIураб меххалълъищин хъалин кьолеб гIадат хвезабулебан абурабила гIандисселълъ. 478. Россассе уней ясалда эбелалълъ малълъарабила - «Дозул доба хъахIалда чIчIегIерабилан абулеб батани, дуццаги гьедин абе, дир яс, чIчIегIералда хъахIабилан абулеб батани, гьединги абе». 479. Россассеги ина, васги гьавила, вацц кисса вахъилев? 480. Россассул къадру-къимат лълъадудассан букIунеб. 481. Россассул рекIелI бугеб жо чIчIужуялълъул кIалдиб букIунеб. Цо ххан вукIаравила кидаго къватIиве вахъунарев «рокъов къурущ». Гьесс къоял инарулел рукIаралила, хъутIахIелеко гIадин, цоялгун вагъун, цоялгун семун, руччабазда гъорлI. Гьессие улка-ракьалълъул ургъелги букIинчIила. Улкаялълъул балъголъабиги, вазирзабазда лъалалдего, руччабазда лъалел рукIаралила. Мадугьалассул чучлъи бихьарав цоги хханасс гьессда лъазабурабила - «Бокьани, рагъде вахъа, бокьичIони, дие пуланал росаби кье!» – ян. Хханасс гьеб балъголъи бищунго йокьулей чIчIужуялда бицарабила, гьелълъги киналго руччабазда гIинчIарабила. Чара хварав ххан цо къоялълъ къватIиве вахъаравила. Къадал ракьандеги ракIарун, гьал гIиссинлъималаз бицунеб жого щибдаян гIенекканила. Бугила гьез бицунеб, мадугьалихъ вугев хханасс нилIер хханассда рагъ лъазабун рагIулила. Вагъизе къуватги гьечIого, чара хун нилIер хханги рагIулила. Гьеб меххалълъ кантIаравила ххан жиндирго гъалатIаздеги ххалкъияб кици битIараб букIиналдеги. 482. Россассулал – лълъадаре, лълъадулал – кIалалълъе. 483. Россги вугей къоролай. 484. Россги вукIуна, росдал гьабзацца квадги вукIуна, чIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна. 485. Россги ГIумаххан вугелълъул, мунгоги Бахху-бикайиланищ ккараб? 486. Росдае гIоло бицараб рагIи – росдае гIоло гьабураб хъулухъ. 487. Росдае ххиянат гьабурав росдал цIецца вухIаги. 488. Росдал анцIилI, бол нусилI. 489. Росдал газа кьурдаги рекIунеб. 490. Росдал гIадат хвеялдасса гIадатаб росу хвей лълъикIаб. 491. Росдал ххабар гIабдалассда гьикъе, рукъалълъул ххабар лъималазда гьикъе. 492. Росдацца хIукму кьуни, хIарпиеги бутIа кьезе кколеб. 493. Росс-лълъади мугъалисса руссараб рукъ – руссунареб сибиралълъул гвенд. 494. Росс-лълъади цолъичIони, рукъ беххе балагьула, рокъоб къир-къир цIцIикIкIани, дунялго къварилъула. 495. Росс-лълъади цоцазда лълъикI лъала, цоял унтараб меххалълъ. 496. Росс-лълъадиялда гьоркьове лIугьарав - гIабдал, гьорода бадиве кIурщарав – ахIмакъ. 497. Росс-лълъадиялълъул гьоркьоблъи лъала, росс жиндирго гурдеялда рукъи базе лIугьараб меххалълъ. 498. Росс-рукъ авадан гьаби лълъадул гьунар-цIцIар буго. 499. Россол рагIал тIерен ккурав, тIабкIил рагIал биццат ккурав. 500. Росу балагьун, къватIив чIвагеги, къватI балагьун, басралъугеги. 501. Росу бахъун, кьурарай, кьибил бахъун, дургъарай. 502. Росу батIиялълъухъ рокьи ккогеги, Кьибил батIияйгун къадар хъвагеги. 503. Росу бихьун, си борххатаб бай. 504. Росу кIодо, ясал гIемер. 505. Росу лIугьун, къачIарав, кьибил лIугьун, вессарав. 506. Росу рикIкIун – гIадат, гIадан рикIкIун – ххассият. 507. Росу тани, росдаццаги толев. 508. Росу тун арав хвезе росулIе вачIунев. 509. Росу – цо рахъалда, Гьимат – цо рахъалда. 510. Росуго рекъараб кьал букIунареб, кьибилго рекъараб ригьин букIунареб. 511. Росугун дагIбадани, чиякълъула, чIчIужугун дагIбадани, кваникълъула. 512. РосулI гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве. 513. РосулIе унти я базарганассул гьирицца бачIунеб, я гьардохъанассул къвачIицца бачIунеб. 514. РосулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. 515. Роххел гIемералълъур кьурдухъаби рахъунел, хвел гIемералълъур магIихъаби рахъунел. 516. Рохол багьа къого гъурущ. Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби абун руго базаралда рахи бичулев вукIарав цо магIаруласс. Цо рохохъ къого гъурущ аби гIад гьабун буго рахи босулесс. 517. Рохоцца гIабдалги, гIакъилги, квешалги, лълъикIалги гIадамал жанире рачуна. Гьелдеги учуз буго гьаб, – ан жаваб кьун буго рахи бичулесс. 518. Рохъдол чед гьабурай, чияр чи веэдарай. 519. Рохьалълъ тала босичIого толаро. 520. РохьдолI букIунареб чIухIухъаналде ЧIалгIараб салам дир махил тIилалълъул! 521. РохьдолI тIохIок камулареб. 522. РохьдолI чIчIа, рохьдолI хва. 523. РохьдолI чIчIолареб хIайваналда тIил щола. 524. Рохьил хIайван рохьоб гурони чIчIоларо. 525. Рохьоб гъотIодаги кидаго цого хIал букIунаребила. 526. Рохьоб хьараб хьодул пайда щибила. 527. Рохьоб цидаги данде чIвагеги кIиго эбелцадахъ. 528. Рохьоб циги ххутIугеги, цого тIинчIалда божун. 529. Рохьоб чан камулареб, чорххолI унти камулареб. 530. Рохьобго гьечIеб талма, талмикьго гьечIеб гIанкIкI. 531. Рохьобе гIащтIийила, гIалххуде таргьайила. 532. Рохьобе кватIи гурони, гьаб пишаялълъул пайда гьечIилан абурабила гъадицца. 533. Рохьобе тΙил босуге, ралъдалIе лълъимги тIоге. 534. Рохьобе тIил босуге, тIилицца хур бекьуге. 535. Рохьовги вукIун, чIахIида цIа бакарав. 536. Рохьор гъутIбиги ращадал рукIунарелила. 537. Рохьосса вуссунаго, лъабоххида вачIа, дадал. 538. Роццалда рекъарабила рукъи букIунеб. 539. РоццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларебила. ВукIаравила кIиго гьудул. ЙикIарайила гьев кIияссего йокьулей цо ясги. Ясалълъги тIасса вищаравила жиндирго ракIалълъ восарав. Гьарунила гьезие лъималги, букIанила лълъикIабго магIишатги. Гьаб дунялалда лIугьунаребги кколаребги жо щибилахха букIунареб, ракIалдаго гьечIого, сапаралълъ цадахъ кканила дов кIиявго гьудул. Бихьуда росу-ракь гьечIеб цо авлахъалдассан унел рукIанила гьел. Дов ясалълъ тIасса вищичIесс, бахъун чвантинисса таманчагун, гьавцояссда абунила жинцца гьаб бакIалда мун чIвалилан. Цин гьудулассда кканила гьаб маххссара батилилан. Ххадуб, гьессда ракIалда бугеб жо маххссара гуреблъиги щай живго чIвазехъин вугевалиги бичIчIидал, гьасс абунила - - Дир хъизаналълъ доб меххалълъ, дун тIасса вищичIого, мун вищун вукIаравани, дида гьеб хIалихьатаб жо ракIалде ккелароан. Гьеб такъсир гьабуни, дирги дир хъизан-лъималазул гуребги, дуцца чIвазе буго дурго гIумруги… - Дирго гIумру дицца кин чIвалеб? Вихьулеб-рагIулеб бакIалда, инсанали щай гурин, хIайвангицин гьечIо. Лълъида лъалеб мун лълъицца чIваравали? Дицца мун цо хъитIнивеги реххила, тIаде ракьги хъвала – абадиялълъ мун вугеб бакIги лълъиданиги лъаларо! - РоццгьечIалълъ бищунги, гьаб дунялалда щибго балъго ххутIуларилан абула. Бачунге дуцца дудего тIаде гьеб балагь… Гьалмагъассул гьел рагIабазда тIадги велъун, хIалихьатицца гьессда таманча речIчIанила. Анила гьелдасса нахъе чанго сонги, ячанила дов хъурумсахъицца чIварассул йикIарай лълъадилъунги. Цо къоялълъ рагъида гIодов чIчIун россги вукIанила, гIисси-бикъинаб хIалтIуде юссун лълъадиги йикIанила. Дагьа-макъаб гьури бугеб къо букIанила гьеб. Киссан бачIарабали лъачIого, гьороцца босун бачIун, гьезул рагъида рещтIанила роццгьечI. Гьелълъухъги валагьун, росс велъанхъанила. Ссундайин мун велъарав, щибин дуда бихьарабан гьикъанила чIчIужуялълъ. Щибниги бихьичIин, ссунданиги велъичIилан чIчIанила росс. Валлагьин, жого бихьичIого, чи велъуларин, мун жинда велъанилан чIчIанила чIчIужу. Асс абунила, алълъ къотIанила, алълъ абунила, асс къотIанила, аххирги гьаб къецц квешаб рахъалде ссверанила. ЧIчIужу чIчIанила, гьабсагIат ссунда мун велъаравали бицинчIони, жий ячIарабго нухалълъ инссул рокъое инилан. Дуе квешезе бицинилан, гьассги жинццаго гьелълъул росс чIваялълъулги, гьелда ццебе ккараб ххабаралълъулги, “роццгьечIалълъ бицунги, гьабурассул гьабураб тIатинчIого ххутIуларилан” гьесс абидал, живго велъиялълъулги бицанила. Гьалейин, гьаб роццгьечI бихьидал, кинабгоги ракIалде щун, велъанилан абунила. ЧIчIужу, гьабулеб хIалтIиги жибго тун, рокъожание анила. Гьенибго лъалинисса хханжарги бахъун, гIодов чIчIарав россассда асскIое ячIанила. Гьелейинхха, битIараб букIун бугин жиндир россасс абураб жойилан, хъубухъун босун къазабунила гьессул чохьолI хханжар. Цинги, жинццаго гьабураб жо бицине, росдал бегавулассухъеги ячIарайила. 540. Роцц унтичIого, хоно букIунареб (роцц унтичIого, гIанкIуялълъ хоноги гьабулареб). 541. Роццадасса цIцIикIкIун, чуги кIанцIуларо. 542. Роцен гьечIеб гIемераб квеналдасса цо роццада кунеб дагьаб квен лълъикIаб. 543. Роцен гьечIеб тIехх хханассул тепсиялдаги букIунареб. 544. РоцIцIагиян цIцIани, цIцIад багиян буртIал. 545. РоцIцIараб зодиссан цIцIер балев Аллагь. 546. РоцIцIараб къоялълъ цIцIаназде цIцIаладерил ясалги унел. 547. Роччухъе дунялги букIунаребила, вачIухъе гьоболги вукIунаревила. 548. Ругезда гьечIеланищан, гьечIезда ругеланищан ккарал жалила лъимал. 549. Ругел-гьечIел лъаларел щайтIабакьа щайила хIинкъулел, гьал къойил рихьулел щайтIаби-гIадамакьа щайила хIинкъуларел. 550. РугънатIе цIцIам щвалареб. 551. Ругъун лъечIого, би бецIцIулареб, цIцIад бачIого, тIох гIекколареб. 552. Ругъун сахлъаниги, гIуж кибего унареб. 553. Ругьунаб гуреб роццалда тIажу рекъоларебила. 554. Ругьунаб оцалълъ гIадин хур бекьуларо. 555. Рузида къад канлъи бихьунгутIи бакъул гIайиб гуреб. 556. Рузман чIирчIидулеб, шамат бадарулеб. 557. Рузманкъо битIани, киналго къоял ритIулел. 558. Рукъ бакъараб ссадакъа гьабуге. 559. Рукъ бакъараб ссадакъа – чехь бакъараб къадеквен. 560. Рукъ бала гIадамал цIунизе, ярагъ бала гIадамал гъуризе. 561. Рукъ берцинлъула къачIаялълъ, чи берцинлъула гIелмуялълъ. 562. Рукъ бечелъаги, чи гIемерлъаги. 563. Рукъ бикъидал, къоно тIамурав (Рукъ бикъун ххадуб гуребила къоно тIамулеб). 564. Рукъ босилалде, мадугьал цIеххе. 565. Рукъ гьабулареб жоялълъ къватI гьабулареб. 566. Рукъ гьечIелълъуб хъошги рукъила. 567. Рукъ гьечIессда чи лъала, чед гьечIессда мацIцI лъала. 568. Рукъ гьитIинаб букIин гьоболассдайила лъалеб. 569. Рукъ къваридав чи – лълъади квешав чи. 570. Рукъ лълъухьараб меххалълъ, хIур бахъунеб гIадат. 571. Рукъ рукъалълъ тIубаги, къайи къайиялълъ цIунаги. 572. Рукъалда асскIоб цIцIорораб иццги тун, хьуцIцIил лълъеда ххадув довегIан унарев. 573. Рукъалда лъалареб къватIалда лъан батулеб, нилIедаго бихьичIеб чияда бихьун батулеб (НилIер – чияда, чияр – нилIеда). 574. Рукъалда нах бахунареб даранги гьабуге, гьойдул балъ гьабулев чи гIадин, гIададаги хIалтIуге. 575. Рукъалда нуцIцIа гьечIев, ахикье гъалду гьечIев. 576. Рукъалда нуцIцIа лъолеб рагьизеги къазеги. 577. Рукъалдасса ххирияб бакІ гьечIеб, лъимадасса ххирияб жо гьечIеб. 578. Рукъалълъ басра гьавурав къватIалълъ ццеве кколарев. 579. Рукъалълъ бетIергьанчи гурев берцин гьавулев, бетIергьанчиясс рукъин гьабулеб. 580. Рукъалълъе кинаб бугониги пайда гьабичIеб къо – гIадада араб къо. 581. Рукъалълъул асслу – кьучIчI, хъизамалълъул асслу – чIчIужу. 582. Рукъалълъул бетIергьанасс гьумер битІичIони, гьобол тIокIав вачIунарев, тIилил бухIи гIезабуни, кето баккарулареб. 583. Рукъалълъул бетIергьанассде мутIигIлъулареб рокъоб гIадлу букIунареб. 584. Рукъалълъул гьечIолъи царгъицца баххчула, черххалълъул гьечIолъи тIингъицца баххчула. 585. Рукъалълъул иххтияр бетIергьанчияссухъ тейила. 586. Рукъалълъул къварилъи къадазда лъала, Дир рекIел къварилъи дидаго лъала. 587. Рукъалълъул къварилъи къватIиб лъагеги, къватIул ххабар рокъоб лъагеги. 588. Рукъалълъул кIалтIа хIелекоги багъулеб, кавудал кIалтIа лъималги рагъулел. 589. Рукъалълъул кIудияв меххтичIони, бертин бетулареб. 590. Рукъалълъул хIал лъималазда лъала, къватIалълъул хIал гIабдалассда лъала. 591. Рукъалълъул ургъел къадаздаги лъалеб. 592. Рукъи бай, каратI кIодолъилалде, дару гьабе, унти ххалалъилалде. 593. Рукъи бараб бугониги, ретIелги гIолеб, хъош гIадаб бугониги, рукъги бегьулеб, мамá гьечIого, чи тIуваларев. 594. Рукъи бараб ретIел ретIунаревги чи гуревила, рукъиялда тIад рукъи баравги чи гуревила. 595. Рукъзал кунарел, кули ретIунареб. 596. Рукъилан абураб бакIалде рукъгIанассеб гьецIцIо босулеб. 597. РукIкIадул рорлIигIанассеб картIиниссан оцол бетIергIанассеб квач бачIунебила. 598. РукIкIен аралълъубейила кунги унеб 599. РукIниб букIун гъулгъудун, гъалбацIалълъ чан чIваларо. 600. Румазул гулгун гIадин, габур цIцIабуцIцIунги вукIунге, эбел-эмен хварав гIадин, гIодовеги къулуге. 601. Руссун херлъичIони, чу херлъуларо. 602. Рухьен тIун, тIил бекун, виччарав. 603. РухI бащад буго, рукь бащад цIцIай! 604. РухI бихьунила хIанчIидасса би баккулеб. 605. РухI речIчIилалде тушман чIваларев рухI речIчIараб меххалълъ тушманасс чIвалев. 606. РухIалда рекъонила биги тIинкIулеб. 607. РухIалицца гIадин чи херлъуларо, мискинлъиялълъ гIадин чи къулуларо. 608. РухIел кIочон тезабулеб ракъиялълъ, квен кIочон тезабулеб ццидацца. 609. Ручун кIудияб – жаниб рак гьечIеб, тIину кIудияб – жаниб мугь гьечIеб. 610. Руччабазда балъгояб жо жундуз бицунебила. 611. Руччабазул базаралълъ рукъ ццебе тIоларо. 612. Руччаби кIодо гьарулел лълъикIав чиясс, ятим инжит гьавулев хIалихьатав чиясс. 613. Рущада гьабураб мусрада гурони толареб. 614. Рущи щваралълъубе гIанкIу бачIунеб, жалго реэдаралълъуре лъимал рачIунел. 615. Рущи щваралълъубе гIанкIу буссуна, каву кIудиялълъуве гьардохъан ссверула.

  • kh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ГI f 1. ГIаба ретIарассе дунги инчIила, чухъа ретIарав диеги щвечIила (чухъа ретIарасс дунги ячинчIила). faba reTaraSe dungi inzila, xu]a reTaraw diyegi &wezila (xu]a reTaraS dungi yaxinzila). 2. ГIабдал берталълъе ахIани, жив анивго чIчIелилан лIугьуневила. fabdal berta:e a\ani, $iw aniwgo Zelilan /uhunewila. 3. ГIабдал бищун ццеве гIиссинлъималаздайила лъалев. fabdal bi&un Cewe fiSin;imala#dayila ;alew. 4. ГIабдал вукIаниги, цIцIодор вукIаниги, аххир цойила. fabdal wujanigi, ~odor wujanigi, a{ir coyila. 5. ГIабдал гьечIони, цIцIогьорассе боцIцIи кисса? fabdal hezoni, ~odoraSe bo~i kiSa? 6. ГIабдал гIодиларо, цIцIодор велъиларо. fabdal fodilaro, ~odor we;ilaro. 7. ГIабдал кьурдуларевила, кьурдани, чIчIоларевила (чIчIезе лъаларебила). fabdal purdularewila, purdani, Zolarewila (Ze#e ;alarebil). 8. ГIабдал кIалъалелълъул, цIцIодор вуцIцIун чIчIолев. fabdal ja;ale:ul, ~odor wu~un Zolew. 9. ГIабдал лумо гьавизе росу бахъараб меххалълъ, гьесс гьикъарабила - «Чан мали бугонидай зодоре гIунтIила?». fabdal lumo hawi#e rosu ba]arab me{a:, heS hiqarabila - «xan mali bugoniday #odore funTila?». 10. ГIабдал рокъове виччаялдасса гIакъил лъорове виччай лълъикIаб. fabdal roqowe wiXayaldaSa faqil ;orowe wiXay :ijab. 11. ГIабдал хIалтIизеги вачунге, гIабдалассда цадахъги хIалтIуге. fabdal \alTi#egi waxunge, fabdalaSda cada]gi \alTuge. 12. ГIабдаласс боцIцIи балагьула, цIцIодорасс гIакълу балагьула. fabdalaS bo~i balahula, ~odoraS faqlu balahula. 13. ГIабдаласс вецциялдасса цIцIодорасс какиго лълъикIила. fabdalaS weCiyaldaSa ~odoraS kakigo :ijila. 14. ГIабдаласс гурони гIабдалассе гIакълу кьоларебила. fabdalaS guroni fabdalaSe faqlu polarebila. 15. ГIабдаласс гурони гIунгутIаби ралагьуларел. fabdalaS guroni funguTabi ralahularel. 16. ГIабдаласс гьедун бицунебила, гIакъиласс кици тIамун бицунебила. fabdalaS hedun bicunebila, faqilaS kici Tamun bicunebila. 17. ГIабдаласс гIодобе бала, цIцIодорасс бищула. (ГIабдаласс гIодобе бараб цIцIодорасс бищула). fabdalaS fodobe bala, ~odoraS bi&ula. (fabdalaS fodobe barab ~odoraS bi&ula). 18. ГIабдаласс квараб жоялълъул бицунеб, цIцIодорасс лъараб жоялълъул бицунеб. fabdalaS kwarab $oya:ul bicuneb, ~odoraS ;arab $oya:ul bicuneb. 19. ГIабдаласс малълъулелдеги гIин тIаме, битIараб батичIони гьабичIого те. fabdalaS ma:uleldegi fin Tame, biTarab batizoni habizogo te. 20. ГIабдаласс нилIее лъабго гIакълу кьуни, цоябниги битIараб батизе бегьулеб. fabdalaS ni/eye ;abgo faqlu puni, coyabnigi biTarab bati#e behuleb. 21. ГIабдалассда бицараб жо – базаралда ахIараб гIакIа. fabdalaSda bicarab $o - ba#aralda a\arab faja. 22. ГIабдалассда гуребила гIайиб букIунеб, гIабдал валъаргъарассдайила. fabdalaSda gurebila fayib bujuneb, fabdal wa;arvaraSdayila. 23. ГIабдалассда гIайиб чIчIоларебила. fabdalaSda fayib Zolarebila. 24. ГIабдалассда данде мунги гIабдаллъун чIчIайила. fabdalaSda dande mungi fabdal;un Zayila. 25. ГIабдалассда кигIан малълъараниги, гьесс жиндирабго гурони гьабулареб. fabdalaSda kifan ma:aranigi, heS $indirabgo guroni habulareb. 26. ГIабдалассда малълъараб жо – гIодобе бортараб чIор. fabdalaSda ma:arab $o - fodobe bortarab zor. 27. ГIабдалассда малълъарани мунго рихунев. fabdalaSda ma:arani mungo ri[unew. 28. ГIабдалассда нич гьечIеб, цIцIогьорассда яхI гьечIеб. fabdalaSda nix hezeb, ~ohoraSda ya\ hezeb. 29. ГIабдалассе бертин къойил букIунеб. fabdalaSe bertin qoyil bujuneb. 30. ГIабдалассе гIабдал вокьулев, гIакъилассе гIакъил вокьулев. fabdalaSe fabdal wopulew, faqilaSe faqil wopulew. 31. ГIабдалассе гIакъил вокьуларев, меххтарассе вигьарав вокьуларев. fabdalaSe faqil wopularew, me{taraSe wiharaw wopularew. 32. ГIабдалассе дару – данде кIалъачIого тей. fabdalaSe daru - dande ja;azogo tey. 33. ГIабдалассе гIадлу гьечIеб. fabdalaSe fadlu hezeb. 34. ГIабдалассул гIеч гIадин гьоркьов инеги чIчIоге. fabdalaSul fex fadin horpow inegi Zoge. 35. ГIабдалассул – зар, гIакъилассул – хIал. fabdalaSul - #ar, faqilaSul - \al. 36. ГIабдалассул кочIохъ гIенеккиялдасса цIцIодорассул семиялълъухъ гIенеккиго лълъикIила. fabdalaSul kozo] feneKiyaldaSa ~odoraSul semiya:u] feneKizogo :ijila. 37. ГIабдалассул кумекалдасса кумекчи гьечIого лълъикI. fabdalaSul kumekaldaSa kumekxi hezogo :ij. 38. ГIабдалассул кIалалда гIакIа гьечIеб. fabdalaSul jalalda faja hezeb. 39. ГIабдалассул – мацIцIалда, цIцIодорассул – рекIеда. fabdalaSul - ma~alda, ~odoraSul - rejeda. 40. ГIабдалассул мацIцIалълъги хIикматаб жо бицуна, щиб гьессул рагIийилан, гIин тIамичIого тоге. fabdalaSul ma~a:gi \ikmatab $o bicuna, &ib heSul rafiyilan, fin Tamizogo toge. 41. ГIабдалассул ракI – мацIцIалдайила, цIцIодорассул мацIцI – ракIалдайила. fabdalaSul raj - ma~aldayila, ~odoraSul ma~ - rajaldayila. 42. ГIабдалассул рекIелгъей умумузул асс-къоялде букIуна, гIакъилассул рекIелгъей лълъикIабщиналде букIуна. fabdalaSul rejelvey umumu#ul aS-qoyalde bujuna, faqilaSul rejelvey :ijab&inalde bujuna. 43. ГIабдалассулги гIакъилассулги аххир цойила (ГIабдал вегулебги – хоб, гIакъил вукъулебги – хоб). fabdalaSulgi faqilaSulgi a{ir coyila (fabdal wegulebgi - [ob, faqil wuqulebgi - [ob). 44. ГIабдалгун кваназегIан, цIцIодоргун вакъиго лълъикI. fabdalgun kwana#efan, ~odorgun waqigo :ij. 45. ГIабдалгун къаццандулев гьессдассаги гIантавила. fabdalgun qaCandulew heSdaSagi gantawila. 46. ГIабдалассулгун гьудуллъиги гьабуге, гьойдулгун маххссараги гьабуге. fabdalaSulgun hudul;i habuge, hoydulgun ma{Saragi habuge. 47. ГIабдалги ахIмакъги рекъон чIчIоларо. fabdalgi a\maqgi reqon Zolaro. 48. ГIабдалги гуккуге, гIабдаласс гуккизеги чIчIоге. fabdalgi guKuge, fabdalaS guKi#egi Zoge. 49. ГIабдалги гIакъилги киназдаго лъала. fabdalgi faqilgi kina#dago ;ala. 50. ГIабдалгун къаццандуге, мунго къунгутIизе. fabdalgun qaCanduge, mungo qunguTi#e. 51. ГIабул чехъечIого, хоноги кунаро. fabul xe[ezogo, [onogi kunaro. 52. ГIагарав чияссул гьан кваниги, ракьа гIодобе реххизе бегьулареб. fagaraw xiyaSul han kwanigi, rapa fodobe re{i#e behulareb. 53. ГIагарлъи лъала къо ккедал, гьудул лъала къваригIел ккедал. fagar;i ;ala qo Kedal, hudul ;ala qwarifel Kedal. 54. ГIагарлъи лъаларессе алжан гьечIебила. fagar;i ;alareSe al$an hezebila. 55. ГIагарлъи цIуне чIаго рукIаго, хвараб меххалълъ «гIагарал чагIи» чанги ратулел. fagar;i `une zago rujago, [warab me{a: «fagaral xafi» xangi ratulel. 56. ГIагарлъиялълъул гьуинлъи гьоркьобакI цIцIикIкIанагIан цIцIикIкIунебила. fagar;iya:ul huin;i horpobaj ~iJanafan ~iJunebila. 57. ГIада-гIадамазе чваххун цIцIад байдал, дие горо бараб дуниял! fada-fadama#e xwa{un ~ad baydal, diye goro barab duniyal! 58. ГIадада бицараб рагIи – гIадада реххараб чIор. fadada bicarab rafi - fadada re{arab zor. 59. ГIадалаб бетIералълъ хIатIазе гIазаб кьолебила. fadalab beTera: \aTa#e fa#ab polebila. 60. ГIадалаб гъурщидасса цIцIодораб нус лълъикIаб. fadalab vur&idaSa ~odorab nus :ijab. 61. ГIадалаб заманалда гIакъилзабигицин гIадаллъулелила. fadalab #amanalda faqil#abigicin fadal;ulelila. 62. ГIадалав вехь хвани боцIцIуе рахIат, гIадалав ххан хвани ххалкъалълъе рахIат. fadalaw we% [wani bo~uye ra\at, fadalaw {an [wani {alqa:e ra\at. 63. ГIадалав гьудулассдасса гIакъилав тушманго лълъикIила. fadalaw hudulaSdaSa faqilaw tu^mango :ijila. Циги чиги цоцазе цIакъ рокьулел рукIун руго. Цицца чи ссундассаго цIунулев вукIун вуго. Гьессда асскIобе чIагояб жо къазе биччалеб букIун гьечIо. Цо нухалда чи кьижун вукIун вуго, ци жиндирго гIадаталда рекъон хъаравуллъуда букIун буго. ТIутI рещтIун буго чияссул надалда. Ццин бахъараб цицца тIотIода кьабураб квачIалълъ тIутIги хун буго, чиги хун вуго. cigi xigi coca#e `aq ropulel rujun rugo. ciCa xi SundaSago `unulew wujun wugo. heSda aSjobe zagoyab $o qa#e biXaleb bujun hezo. co nu[alda xi pi$un wujun wugo, ci $indirgo fadatalda reqon ]arawul;uda bujun bugo. TuT re&Tun bugo xiyaSul nadalda. Cin ba]arab ciCa ToToda paburab kwaza: TuTgi [un bugo, xigi [un wugo. 64. ГIадалав гIагарав чияссдасса цIцIодорав мадугьал анцIцIцIул лълъикIав. fadalaw fagaraw xiyaSdaSa ~odoraw maduhal an`~ul :ijaw. 65. ГIадалав ххан – къвачIинибе бараб цIулакьо. fadalaw {an - qwazinibe barab `ulapo. 66. ГIадалав чи ЯхIия гудрадаго гIанкIкI тарав. fadalaw xi ya\ya gudradago fanJ taraw. 67. ГIадалай бикаялдасса гIакъилай гъарабашго лълъикI. fadalay bikayaldaSa faqilay varaba^go :ij. 68. ГIадалнахги ххунчIрулги цоцалълъ журараб меххалълъ гIолохъанчи вукIунарев (кколарев). fadalna[gi {unzrulgi coca: $urarab me{a: folo]anxi wujunarew (Kolarew). 69. ГIадамаз гьагу бачани дуццаги гьагу баче, гIадамаз цIцIекIу бачани, дуццаги цIцIекIу баче. fadama# hagu baxani duCagi hagu baxe, fadama# ~eju baxani duCagi ~eju baxe. 70. ГIадамаз квешав чи вугилан абиялдасса кватIичIого хабалIе инго лълъикI. fadama# kwe^aw xi wugilan abiyaldaSa kwaTizogo [aba/e ingo :ij. 71. ГIадамаз къимат гьабулареб кIиго жойила дунялалда бугеб - сахлъиги эркенаб заманги. fadama# qimat habulareb jigo $oyila dunyalalda bugeb - sa[;igi erkenab #amangi. 72. ГIадамаз малълъухъе гьабуге, гьез гьабухъе гьабе. fadama# ma:u]e habuge, he# habu]e habe. 73. ГIадамаз ракь кваназабула – ракьалълъ гIадамал кваназарула. fadama# rap kwana#abula - rapa: fadamal kwana#arula. 74. ГIадамазда гъорлI вукIине лъайги кIудияб гIелму буго. fadama#da vor/ wujine ;aygi judiyab felmu bugo. 75. ГIадамазда гьоркьов - лълъикIав чи, живго ххутIидал – ххиянатчи. fadama#da horpow - :ijaw xi, $iwgo {uTidal - {iyanatxi. 76. ГIадамазда гьоркьой хханассул бика гIадай, балъда нахъа хъартил тIинчI гIадай. fadama#da horpoy {anaSul bika faday, ba;da na]a ]artil Tinz faday. 77. ГIадамазда чIалгIарав, Аллагьассда рихарав (ГIиссиназда чIалгIарав, чIахIиязда рихарав). fadama#da zalfaraw, allahaSda ri[araw (fiSina#da zalfaraw, za\iya#da ri[araw). 78. ГIадамаздасса ццевеги кIанцIуге, нахъаги ххутIуге. fadama#daSa Cewegi jan`uge, na]agi {uTuge. 79. ГIадамазе вокьарав Аллагьассеги вокьулев. fadama#e woparaw allahaSegi wopulew. 80. ГIадамазе баркала кьоларесс Аллагьассеги кьоларо. fadama#e barkala polareS allahaSegi polaro. 81. ГIадамазе – гьан, гьабзазе – рукьби, мискинассе – ратIа, бечедассе – бохх. fadama#e - han, hab#a#e - rupbi, miskinaSe - raTa, bexedaSe - bo{. 82. ГIадамазе гьойлъарав, гьабзазе ракьалъарав. fadama#e hoy;araw, hab#a#e rapa;araw. 83. ГIадамазе рикъзи кьеги, Аллагь, дие чорххое сахлъи кьеги. fadama#e riq#i pegi, allah, diye xor{oye sa[;i pegi. 84. ГIадамазул абундачаз азбаралълъул гъапу къани, къватIир ххутIулелила. fadama#ul abundaxa# a#bara:ul va_u qani, qwaTir {uTulelila. 85. ГIадамазул гIабдал – чанахъан, чуязул гIабдал – юргъачу. fadama#ul fabdal - xana]an, xuya#ul fabdal - yurvaxu. 86. ГIадамазул кIал бухьине кIолареб. fadama#ul jal bu%ine jolareb. 87. ГIадамазул хIурмат гьабунгутIи дурго хIурмат гьабунгутIи ккола. fadama#ul \urmat habunguTi durgo \urmat habunguTi Kola. 88. ГIадамазухъего иш гьабизе лIугьунге. fadama#u]ego i^ habi#e /uhunge. 89. ГIадамал ахIуд унелълъул - чехь унтарав, бахIарзал кьалде щолелълъул - мугъ унтарав. fadamal a\ud une:ul - xe% untaraw, ba\ar#al palde &ole:ul - muv untaraw. 90. ГIадамал бакъвараб бакIалдассан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа, хIарщулIан рилълъани, мунги гьениссан вилълъа. fadamal baqwarab bajaldaSan ri:ani, mungi heniSan wi:a, \ar&u/an ri:ani, mungi heniSan wi:a. 91. ГIадамал берталълъ кьурдулел, цIцIогьор нуцIцIида кIулал ран ратидал кьурдулев. fadamal berta: purdulel, ~ohor nu~ida julal ran ratidal purdulew. 92. ГIадамал гурхIизеян гIодарай, давла щвезеян щокълъарай. fadamal gur\i#eyan fodaray, dawla &we#eyan &oq;aray. 93. ГIадамал гIемералълъуб чехь къай, чи гIемералълъуб бер къай. fadamal femera:ub xe% qay, xi femera:ub ber qay. 94. ГIадамал какуге, мунго веццуге. fadamal kakuge, mungo weCuge. 95. ГIадамал киналго лълъикIал рукIинаан, «кIиго рагIи» лълъиццаниги бицунаребани. fadamal kinalgo :ijal rujinaan, «jigo rafi» :iCanigi bicunarebani. 96. ГIадамал къулухъе къула, гIадамал рорххухъе ворхха. fadamal qulu]e qula, fadamal ror{u]e wor{a. 97. ГIадамал кьурдахъе кьурдизеги лъаларев, кьурдичIого чIчIезеги лъаларев. fadamal purda]e purdi#egi ;alarew, purdizogo Ze#egi ;alarew. 98. ГIадамал лъанагIан гьаби рокьулел рукIун руго. fadamal ;anafan habi ropulel rujun rugo. 99. ГIадамал ритIизаризе лIугьарав тIекъав чи – рагIад битIулареб тIил. fadamal riTi#ari#e /uharaw Teqaw xi - rafad biTulareb Til. 100. ГIадамал рихьизе – берал, нилIго рихьизе – матIу. fadamal ri%i#e - beral, ni/go ri%i#e - maTu. 101. ГIадамал хваралълъув хва, гIадамал рахъаралълъув вахъа. fadamal [wara:uw [wa, fadamal ra]ara:uw wa]a. 102. ГIадамал хваралълъув хвезеги вас вукIин талихI. fadamal [wara:uw [we#egi was wujin tali\. 103. ГIадамал хола, бахIарчи даим чIаго вукIуна. fadamal [ola, ba\arxi daim zago wujuna. 104. ГIадамалгун кьал ахIи ахIмакъассул иш буго. fadamalgun pal a\i a\maqaSul i^ bugo. 105. ГIадамалълъ вукIине лъаларессе дуниялги къваридаб, бетIербахъиги мукъссанаб. fadama: wujine ;alareSe duniyalgi qwaridab, beTerba]igi muqSanab. 106. ГIадамалI хва, гIадамалI вахъа (болI хва, болI вахъа). fadama/ [wa, fadama/ wa]a (bo/ [wa, bo/ wa]a). 107. ГIадамассдасса – боцIцIи, боцIцIудасса – цIарагI. fadamaSdaSa - bo~i, bo~udaSa - `araf. Кици буго гьадинаб божиялда тIад гIуцIцIараб, тIаде рачIунел балагьаздасса бетIергьаби цIунизе холебила хIайван. Гьединалго балагьаздасса хIайванал цIунизе бекулебила цIарагI. kici bugo hadinab bo$iyalda Tad fu~arab, Tade razunel balaha#daSa beTerhabi `ini#e [olebila \aywan. hedinalgo balaha#daSa \aywanal `uni#e bekulebila `araf. 108. ГIадамассе гIаданлъун вукIа, гьойда данде бацIлъун вукIа. fadamaSe fadan;un wuja, hoyda dande ba`;un wuja. 109. ГIадамассе къимат хIалтIи бихьун кье, хIайваналълъе къимат пайда бихьун кье. fadamaSe qimat \alTi bi%un pe, \aywana:e qimat _ayda bi%un pe. 110. ГIадамассе рецц – черххалда бахине нах. fadamaSe reC - xer{alda ba[ine na[. 111. ГIадамассул бищун кIудияб гIадаллъи – гIадамал жиндасса гIадалал ругилан ккей. fadamaSul bi&un judiyab fadal;i - fadamal $indaSa fadalal rugilan Key. 112. ГIадамассул квешлъи – гIамал кIодолъи, гIакдал квешлъи – рахь биччангутIи. fadamaSul kwe^;i - famal jodo;i, fakdal kwe^;i - ra% biXanguTi. 113. ГIадамассул ракI дуниял рагIалда, гIажалалълъул мугьру мугъалда нахъа. fadamaSul raj duniyal rafalda, fa$ala:ul muhru muvalda na]a. 114. ГIадамассул хIал кунеб, хIайваналълъул гьан кунеб. fadamaSul \al kuneb, \aywana:ul han kuneb. Кици буго къокъаб, тIассан пасихIаб букIиналда цадахъ жаниссан магIнаги гъваридаб. Абулеб буго, хIайван хьихьиялдассан асслияб мурад гьанги нахги бугеб гIадин, гIадан тIасса вищизе ккани, асслияб жо – хIал лълъикIлъи, тIабигIат лълъикIав вукIин бугилан. kici bugo qoqab, TaSan _asi\ab bujinalda cada] $aniSan mafnagi vwaridab. abuleb bugo \aywan %i%iyaldaSan aSliyab murad hangi na[gi bugeb fadin, fadan TaSa wi&i#e Kani aSliyab $o - \al :ij;i, Tabifat :ijaw wujin bugilan. 115. ГIадамассул чорххое гIелму – гIатIгояб гъотIое регьел. fadamaSul xor{oye felmu - faTgoyab voToye rehel. 116. ГIадамассулIан гуребила канлъи бихьулеб, рагIулIанила. fadamaSu/an gurebila kan;i bi%uleb, rafu/anila. 117. ГIадан адабалълъила берцин гьавулев. fadan adaba:ila bercin hawulew. 118. ГIадан басра гьави мунгоги басра гьави ккола. fadan basra hawi mungogi basra hawi Kola. 119. ГIадан басра гьавурассда басрияб къо бихьула. fadan basra hawuraSda basriyab qo bi%ula. 120. ГIадан божулареб гIумруялдасса цIунаги. fadan bo$ulareb fumruyaldaSa `unagi. 121. ГIадан ватани гIадамалълъ вукIа, гурев ватани хIайваналълъ вукIа. fadan watani fadama: wuja, gurew watani \aywana: wuja. 122. ГIадан вижулевила, гIакълу бачIунебила. fadan wi$ulewila, faqlu bazunebila. 123. ГIадан вихьун чучуге, чи вихьун рагIи бицунге. fadan wi%un xuxuge, xi wi%un rafi bicunge. 124. ГIадан вукIуневила богIолI гьоло гIадавги гьалилI сусур гIадавги. fadan wujunewila bofo/ holo fadawgi hali/ susur fadawgi. 125. ГIадан гогь гьавулебги – боцIцIи, пашман гьавулебги – боцIцIи. fadan goh hawulebgi - bo~i, _a^man hawulebgi - bo~i. 126. ГIадан гурев чияссда жо малълъи – лълъеда бикIараб накъищ. fadan gurew xiyaSda $o ma:i - :eda bujarab naqi&. 127. ГIадан гIадамассде кколевила, мегIер мегIералде кколаребила. fadan fadamaSde Kolewila, mefer meferalde Kolarebila. 128. ГIадан гIадамассе – матIу. fadan fadamaSe - maTu. 129. ГIадан гIакълуялълъ берцин гьавула, ретIел букъиялълъ берцин гьабула. fadan faqluya: bercin hawula, reTel buqiya: bercin habula. 130. ГIадан – гIатIгояб жо. fadan - faTgoyab $o. 131. ГIадан гIодов ватуларев, вичун восизе щоларев. fadan fodow watularew, wixun wosi#e &olarew. 132. ГIадан гIорцIцIидал гIергIедулевила, хIайван бакъидал гIергIедулебила. fadan for~idal ferfedulewila, \aywan baqidal ferfedulebila. 133. ГIадан квегъе берцинаб рагIиялълъ, бугъа квегъе биццатаб тIилалълъ. fadan kweve bercinab rafiya:, buva kweve biCatab Tila:. 134. ГIадан кколеб жо – бугIа, гIадан чIвалеб жо – чIагIа. fadan Koleb $o - bufa, fadan zwaleb $o - zafa. 135. ГIадан кIиго нухалълъила загIипав вукIунев, вижулагоги холагоги. fadan jigo nu[a:ila #afi_aw wujunew, wi$ulagogi [olagogi. 136. ГIадан рагIуцца реххулев, хIайван чохьоцца реххулеб. fadan rafuCa re{ulew, \aywan xo%oCa re{uleb. 137. ГIадан ракьулIе уна, хIайван хьагинибе уна, лълъикIаб иш нахъе ххутIула. fadan rapu/e una, \aywan %aginibe una, :ijab i^ na]e {uTula. 138. ГIадан рекIинчIеб чуги, чи кIалъачIей ясги рукIунарел. fadan rejinzeb xugi, xi ja;azey yasgi rujunarel. 139. ГIадан рикIкIун – хIал, хIайван рикIкIун – лIар. fadan riJun - \al, \aywan riJun - /ar. 140. ГIадан ссипат-ссураталълъ гуревила берцин гьавулев, захIматалълъила. fadan Si_at-Surata: gurewila bercin hawulew, #a\mata:ila. 141. ГIадан хола, гIаданлъи нахъе ххутIула, хIама хола, тIом гурони ххутIуларо. fadan [ola, fadan;i na]e {uTula, \ama [ola, Tom guroni {uTularo. 142. ГIадан хIал бихьун вецце, хIайван гьан бихьун бецце. fadan \al bi%un weCe, \aywan han bi%un beCe. 143. ГIадан чIвалеб жо – чIухIи. fadan zwaleb $o - zu\i. 144. ГIадан щола ракIалълъ къотIараб бакIалде. fadan &ola raja: qoTarab bajalde. 145. ГIаданилан гIадамалълъ гурев, хIайванилан хIайваналълъ гурев. fadanilan fadama: gurew, \aywanilan \aywana: gurew. 146. ГIаданлъи гьабизе кватIун букIунареб. fadan;i habi#e kwaTun bujunareb. 147. ГIаданлъи гьечIеб черхх – чилъи гьечIеб ракI. fadan;i hezeb xer{ - xi;i hezeb raj. 148. ГIаданлъи гьечIелълъуб гьудуллъи чIчIолареб. fadan;i heze:ub hudul;i Zolareb. 149. ГIаданлъиялълъулги цIезе бегьулебила таргьа. fadan;iya:ulgi `e#e behulebila tarha. 150. Чачаналде гьирихъ ун рукIанила гIандал. xaxanalde hiri] un rujanila fandal. 151. ТIад руссун рачIунаго, цо росулI гьезда кверкьаби ратанила. Цадахъ рукIаразда цоясс абунила - «Гьаниб хвел ккун бихьула. РачIа нилIецца, гьагъазда зигараги бан, гIаданлъи гьабизин». Tad ruSun razunago, co rosu/ he#da kwerbaqi ratanila. cada] rujara#da coyaS abunila - «hanib [wel Kun bi%ula. raza ni/eCa hava#da #igaragi ban, fadan;i habi#in». 152. ГIаданлъиялълъул цIун буго! ГIаданлъиялълъул! – ан абунила гьесс гьалмагъзабазда… fadan;iya:ul `un bugo! fadan;iya:ul! - an abunila heS halmav#aba#da... 153. ГIадат бугила, бетIергьанчиясс бачунеб хIама гIадин, бачухъе билълъунеб жо (Гьабухъе букIунеб жойила гIадат). fadat bugila beTerhanxiyaS baxuneb \ama fadin baxu]e bi:uneb $o (habu]e bujuneb $oyila fadat). 154. ГIадлу – алжаналълъул кIул. fadlu - al$ana:ul jul. 155. ГIадлу – багIараб месед. fadlu - bafarab mesed. 156. ГIадлу гьечIеб рокъоб рекъел букIунареб. fadlu hezeb roqob reqel bujunareb. 157. ГIадлу гьечIеб росулI гIакIа гIемераб ахIула. fadlu hezeb rosu/ faka femerab a\ula. 158. ГIадлу гьечIев хIаким – рехъен бихьуларев вехь. fadlu hezew \akim - re]en bi%ularew we%. 159. ГIадлу гьечIев цIцIалдохъанассул цIцIар гIемер ахIизе ккола. fadlu hezew ~aldo]anaSul ~ar femer a\i#e Kola. 160. ГIадлу цIцIикIкIаралълъуб цIцIогь дагьаб. fadlu ~iJara:ub ~oh dahab. 161. ГIадлуялълъулI гIажал гьечIеб, вуххиялълъул ххайир гьечIеб. fadluya:u/ fa$al hezeb, wu{iya:ul {ayir hezeb. 162. ГIажал лъала ганчIида. fa$al ;ala ganzida. МагIарулазул гIадат буго, жал мурадалде щолищан бихьизе, «бичч-бакъ» реххулеб. Алмасил МухIумиццаги реххун буго «бичч-бакъ», чанцIцIул рехханиги, гьессул анищалда рекъон ккун гьечIо эххеде реххараб гамачI. Цинги Алмасиласс гамачI, гьадал рагIабиги абун, хьуризабун буго. mafarula#ul fadat bugo, $al muradalde &oli&an bi%i#e, «biX-baq» re{uleb. almasil mu\umiCagi re{un bugo «biX-baq», xan~ulni re{anigi, heSul ani&alda reqon Kun hezo e{ede re{arab gamaz. cingi almasilaS gamaz, hadal rafabi abun, %uri#abun bugo. 163. ГIажалалда гъураб меххалълъ гIункIкIал кутулгун расандулел. fa$alalda vurab me{a: funJal kutulgun rasandulel. 164. ГIажалалде гъейгун, болъон гохIде бахунебила. fa$alalde veygun bo;on go\de ba[unebila. 165. ГIажалан абурассда унтиян абулеб, унтиян абурассда толоян абулеб. fa$alan aburaSda untiyan abuleb, untiyan aburaSda toloyan abuleb. 166. ГIажамиясс къуръан гIадин гьабила, къулгьу! – ян абурабила гIарабалълъ бечIчIизе букIунареб гIакдада. fa$amiyaS qur'an fadin habila, qulhu! - yan aburabila faraba: beZi#e bujunareb fakdada. 167. ГIазаб чIамичIого, мурадалде щоларел. fa#ab zamizogo muradalde &olarel. 168. ГIаздатIаги лъалкI толарев. fa#daTagi ;alj tolarew. 169. ГIазукь букIаниги дерец тIегь ккола, тIалтIа бижаниги хъутур чIахI ккола. fa#up bujanigi derec Teh Kola, TalTa bi$anigi ]utur za\ Kola. 170. ГIазулI вачIунге, гьоролI вачIаян абулебила цIцIогьорасс гьалмагъассда. fa#up wazunge, horo/ wazayan abulebila ~ohoraS halmavaSda. 171. ГIазулIги хIур букIунеб. fa#u/gi \ur bujuneb. 172. ГIайиб бадибе гьаби бадибе рецц гьабиялдасса нусцIцIул лълъикIаб. fayib badibe habi badibe reC habiyaldaSa nus~ul :ijab. 173. ГIайиб буго вокьуларев чияссда букIунеб жо. fayib bugo wopularew xiyaSda bujuneb $o. 174. ГIайиб буго къурассда букIунеб жо. fayib bugo quraSda bujuneb $o. 175. ГIайиб гьечIев гьудул ватуларев, багьана гьечIей лълъади йикIунарей. fayib hezew hudul watularew, bahana hezey :adi yijunarey. 176. ГIайиб гьечIессе кьураб нагIана дудего буссунебила. fayib hezeSe purab nafana dudego buSunebila. 177. ГIайиб ГIумарида – хъапасал дида. fayib fumarida - ]a_asal dida. 178. ГIайиб камурав чи вукIунарев, цо рахъ камичIеб хIалтIи букIунареб. fayib kamuraw xi wujunarew, co ra] kamizeb \alTi bujunareb. 179. ГIайиб кколареб черххги букIунареб, гIазу балареб мегIерги букIунареб. fayib Kolareb xer{gi bujunareb, fa#u balareb mefergi bujunareb. 180. ГIайиб кколарев чи вукIунарев, гIамал гьечIеб черхх букIунареб. fayib Kolarew xi wujunarew, famal hezeb xer{ bujunareb. 181. ГIайиб кколарей чIчIужу ялагьулев, чIчIужу гьечIого ххутIулев. fayib Kolarey Zu$u yalahulew, Zu$u hezogo {uTulew. 182. ГIайиб кIалалда кколеб, зар бетIералда щолеб. fayib jalalda Koleb, #ar beTeralda &oleb. 183. ГIайиб – къватIиб, дун – рокъов. fayib - qwaTib, dun - roqow. 184. ГIайиб лълъилго кколебила, мунагь ккезе вукIунгейила. fayib :ilgo Kolebila, munah Ke#e wujungeyila. 185. ГIайибал рорцани меххелалда жаниб 200 россассда 200 чIчIужуялда кколебила. РорцинчIого тани, цониги кколаребила. fayibal rorcani me{elalda $anib 200 roSaSda 200 Zu$uyalda Kolebila. rorcinzogo tani, conigi Kolarebila. 186. ГIайибалда къвал барав, мунагьалда кьан барав. fayibalda qwal baraw, munahalda pan baraw. 187. ГIайибалдасса къадарабги гIила букIунебила. fayibaldaSa qadarabgi fila bujunebila. 188. ГIайибалдасса нечоларев, мунагьалдасса хIинкъуларев. fayibaldaSa nexolarew, munahaldaSa \inqularew. 189. ГIайибалълъ чехь бихъулареб носоцца гурони. fayiba: xe% bi]ulareb nosoCa guroni. 190. ГIайибав тамихIалълъукьа хIинкъулевила, гIайиб гьечIев къисматалълъукьа хIинкъулевила. fayibaw tami\a:upa \inqulewila, fayib hezew qismata:upa \inqulewila. 191. ГIака балагье рахь-нахалълъе лълъикIаб, чIчIужу ялагье гIамал-ххассият лълъикIай. faka balahe ra%-na[a:e :ijab, Zu$u yalahe famal-{aSiyat :ijay. 192. ГIака бечIчIизе лъаларелълъ азбар (лолон) гьетIараб бугилан абурабила. faka beZi#e ;alare: a#bar (lolon) heTarab bugilan aburabila. 193. ГIака бечIчIулелилан хIама бечIчIулел ратугеги. faka beZulelilan \ama beZulel ratugegi. 194. ГIака бичаравги, туххум таравги чи бечелъуларо. faka bixarawgi, tu{um tarawgi xi bexe;ularo. 195. ГIака биче бечIчIизе букIунареб, ригьин биххе дургун хIал рекъолареб. faka bixe beZi#e bujunareb, rihin bi{e durgun \al reqolareb. 196. ГIака бокьула нахулаб, гIадан вокьула гIамал лълъикIав. faka bopula na[ulab, fadan wopula famal :ijaw. 197. ГIака босейила рахьдалаб, чIчIужу ячейила гIамал берцинай. faka boseyila ra%dalab, Zu$u yaxeyila famal bercinay. 198. ГIака босилалде бокь гьабе, чIчIужу ячиналде рукъ гьабе. faka bosilalde bop habe, Zu$u yaxinalde ruq habe. 199. ГIака гьечIеб къайи – гIи гьечIеб ручун. faka hezeb qayi - fi hezeb ruxun. 200. ГIака какун нах кварай, росс какун рукъ кварай. faka kakun na[ kwaray, roS kakun ruq kwaray. 201. ГIака кьанагъдичIони кьандиб жо бугъилги багъарулареб. faka panavdizoni pandib $o buvilgi bavarulareb. 202. ГIака лъала лъабцIцIул къинлъидал, вас лъала эмен херлъидал. faka ;ala ;ab~ul qin;idal, was ;ala emen [er;idal. 203. ГIака ххаххаралълъул – бече хIалакъаб, кето кьариялълъул – хIама хIалакъаб. faka {a{ara:ul - bexe \alaqab, keto pariya:ul - \ama \alaqab. 204. ГIака чIчIегIераб бугониги, рахь хъахIаб букIуна. faka Zeferab bugonigi, ra% ]a\ab bujuna. 205. ГIакайилан ккун хIама бечIчIарай. fakayilan Kun \ama beZaray. 206. ГIакарумагIарда гIодоб чIчIараб оцгIанаб гIазу бугони, Ххунзахъ рекьи хъукьлъулареб. fakarumafarda fodob Zarab ocfanab fa#u bugoni, {un#a] repi ]up;ulareb. 207. ГIакдалгун нилIер бугеб жо – даран. fakdalgun ni/er bugeb $o - daran. 208. ГIакдацца гуребила рахь кьолеб, чуруццайила. fakdaCa gurebila ra% poleb, xuruCayila. 209. ГIакдацца рачIчI хьвагIичIони бугъа ххадуб унареб. fakdaCa raZ %wafizoni buva {adub unareb. 210. ГIакъил гIадада кIалъаларев. faqil fadada ja;alarew. 211. ГIакъил гIодове виччан кIалъала, гIабдал ахIдола. faqil fodowe wiXan ja;ala, fabdal a\dola. 212. ГIакъил кици тIамун кIалъала, гIабдаласс гьедун бицуна. faqil kici Tamun ja;ala, fabdalaS hedun bicuna. 213. ГIакъил къадруялде вахани мегIергIан кьуруларев, гIабдал даражаялде вахани хIотол сум гIадин гьетIарулев. faqil qadruyalde wa[ani meferfan purularew, fabdal dara$ayalde wa[ani \otol sum fadin heTarulew. 214. ГIакъил мекъи ккани, гIемерал мекъи ккола. faqil meqi Kani, femeral meqi Kola. 215. ГIакъил тIоццеве гIакъилассда лъала, гIабдал тIоццеве гIиссинлъималазда лъала. faqil ToCewe faqilaSda ;ala, fabdal ToCewe fiSin;imala#da ;ala. 216. ГIакъилчи хвани нахъе лълъикIаб цIцIар ххутIула, гIалимчи хвани лълъикIаб асар ххутIула. faqilxi [wani na]e :ijab ~ar {uTula, falimxi [wani :ijab asar {uTula. 217. ГIакъилаб бетIералълъе тIил къваригIунареб. faqilab beTera:e Til qwarifunareb. 218. ГIакъилаб гьой гIадада хIапдолареб, гIакъилав чи гIадада чвархъоларев. faqilab hoy fadada \a_dolareb, faqilaw xi fadada xwar]olarew. 219. ГIакъилаб жо бицине ххалатаб калам къваригIунаро. faqilab $o bicine {alatab kalam qwarifunaro. 220. ГIакъилав мискинчи къого бечедассдасса лълъикIав. faqilaw miskinxi qogo bexedaSdaSa :ijaw. 221. ГIакъилав чияссул гIантал лъималги рукIунел, гIантав чияссул гIакъилалги рукIунел. faqilaw xiyaSul fantal ;imalgi rujunel, fantaw xiyaSul faqilalgi rujunel. 222. ГIакъилавлъун вукIине квалквал гьабула гIакъилавлъун вукIине жигар бахъиялълъ. faqilaw;un wujine kwalkwal habula faqilaw;un wujine $igar ba]iya:. 223. ГIакъилал руцIцIун чIчIарабги заман бачIунебила. faqilal ru~un Zarabgi #aman bazunebila. 224. ГIакъилал эбел-инссулги рукIине бегьулелила гьагал лъимал. faqilal ebel-inSulgi rujine behulelila hagal ;imal. 225. ГIакъиласс бихьараб-рагIараб бицуна, гIабдаласс чохьол бицуна. faqilaS bi%arab-rafarab bicuna, fabdalaS xo%ol bicuna. 226. ГIакъиласс гIакъилай чIчIужу ялагьула, гIабдаласс гьумер берцинай ялагьула. faqilaS faqilay Zu$u yalahula, fabdalaS humer bercinay yalahula. 227. ГIакъиласс магIардаги ах гьабулеб, гIабдаласс гIанкIудул ханазул тIамуниги лал бокъинабулареб. faqilaS mafardagi a[ habuleb, fabdalaS fanjudul [ana#ul Tamunigi lal boqinabulareb. 228. ГIакъиласс ургъун бицуна, гIабдаласс кьвагьун биччала. faqilaS urvun bicuna, fabdalaS pwahun biXala. 229. ГIакъиласс цо чIчIужу ячуней, гIабдаласс чан щваниги ячуней. faqilaS co Zu$u yaxuney, fabdalaS xan &wanigi yaxuney. 230. ГIакъилассда малълъе, гIабдал гурони вуххуге. faqilaSda ma:e, fabdal guroni wu{uge. 231. ГIакъилассдасса ватIалъуге, гIабдалассда нахъвилълъунге. faqilaSdaSa waTa;uge, fabdalaSda na]wi:unge. 232. ГIакъилассдассан гIакълу щола, гIабдалассдассан щибго щоларо. faqilaSdaSan faqlu &ola, fabdalaSdaSan &ibgo &olaro. 233. ГIакъилассе вокьула жиндасса гIакъилав чи, хханассе бокьула бищунго гIакъилавлъун живго вукIине. faqilaSe wopula $indaSa faqilaw xi, {anaSe bopula bi&ungo faqilaw;un $iwgo wujine. 234. ГIакъилассе – ишан, гIабдалассе – бугI-бугI. faqilaSe - i^an, fabdalaSe - buf-buf. 235. ГIакъилассе къварилъи – гIабдалассе роххел. faqilaSe qwari;i - fabdalaSe ro{el. 236. ГIакъилассул газа кьурдаги рекIунеб, лълъим лъалессул квер гIордаги балеб. faqilaSul ga#a purdagi rejuneb, :im ;aleSul kwer fordagi baleb. 237. ГIакъилассул гIакълу къалмиццаги бицунеб. faqilaSul faqlu qalmiCagi bicuneb. 238. ГIакъилассул гIакълу рекIелI букIуна, гIабдалассул гIакълу мацIцIалда букIуна. faqilaSul faqlu reje/ bujuna, fabdalaSul faqlu ma~alda bujuna. 239. ГIакъилассул къассдал дагьал, къассдал гIемерассул гIакълу дагьаб. faqilaSul qaSdal dahal, qaSdal gemeraSul faqlu dahab. 240. ГIакъилассда рагIи рагIал баккарабго бичIчIулеб, гIабдалассда бугIизе кколеб. faqilaSda rafi rafal baKarabgo biZuleb, fabdalaSda bufi#e Koleb. 241. ГIакъилассул ссабру кIудияб, жагьилассул ццин ххеххаб. faqilaSul Sabru judiyab, $ahilaSul Cin {e{ab. 242. ГIакъиласс ункъо жо гьитIинаблъун рикIкIунареб - цIаги, унтиги, тушманлъиги, налъиги. faqilaS unqgo $o hiTinab;un riJunareb - `agi, untigi, tu^man;igi, na;igi. 243. ГIакъилассул хвел цо буго. faqilaSul [wel co bugo. 244. ГIакъилассул хIалтIи гIемераб, гIабдалассул чIанда гIемераб. faqilaSul \alTi femerab, fabdalaSul zanda femerab. 245. ГIакъилги къосунев, гIабдалассулги цIцIодораб жо кколеб. faqilgi qosunew, fabdalaSulgi ~odorab $o Koleb. 246. ГIакъилгун ургъун давла босе, гIабдалгун ургъун балагь тIаде цIцIаге. faqilgun urvun dawla bose, fabdalgun urvun balah Tade ~age. 247. ГIакъилзаби гIемерлъиялълъ гIакълу босизе чиго гьечIого ххутIун ругила. faqil#abi femer;iya: faqlu bosi#e xigo hezogo {uTun rugila. 248. ГIакъиллъи ботIролI бугев ссабруялда хьвадула, ссабруялда хьвадарав мурадалде вахуна. faqil;i boTro/ bugew Sabruyalda %wadula, Sabruyalda %wadaraw muradalde wa[una. 249. ГIакъиллъи тIаде ккола, ахIмакълъи гъоркье ккола. faqil;i Tade Kola, a\maq;i vorpe Kola. 250. ГIакълу бугел кантIулел, жо бичIчIулез росулел жалила кицаби. faqlu bugel kanTulel, $o biZule# rosulel $alila kicabi. 251. ГIакълу бикъулареб, я гIодобе бортулареб. faqlu biqulareb, ya fodobe bortulareb. 252. ГIакълу бикьулелълъул бакъалда тарав, намус бикьулелълъул гьоркьов ххутIарав. faqlu bipule:ul baqalda taraw, namus bipule:ul horpow {uTaraw. 253. ГIакълу бикьулелълъул нахъа ххутIарай, ххабар бикьулелълъул ццее кIанцIарай. faqlu bipule:ul na]a {uTaray, {abar bipule:ul Ceye jan`aray. 254. ГIакълу ботIрол кIодолъиялда бараб букIунебани, ганщил бищунго кIудияб букIинаанила. faqlu boTrol jodo;iyalda barab bujunebani, gan&il bi&ungo judiyab bujinaanila. 255. ГIакълу бугев инссуцца вас бергьине толарев. faqlu bugew inSuCa was berhine tolarew. 256. ГIакълу бугила нилIее къваригIараб меххалълъ чияхъ батулеб, чияе къваригIараб меххалълъ нилIехъ батулеб жо. faqlu bugila ni/eye qwarifarab me{a: xiya] batuleb, xiyaye qwarifarab me{a: ni/e] batuleb $o. 257. ГIакълу гьаре, боцIцIи гьаруге. faqlu hare, bo~i haruge. 258. ГIакълу гьечIеб бетIер, чIобогояб ракI, гIадалал ххиялаз хвана гIадада. faqlu hezeb beTer, zobogoyab raj, fadalal {iyala# [wana fadada. 259. ГIакълу гьечIеб бетIералда жаниб бугеб гIелму – бетIер гьечIеб къаркъалаялда лъураб тIагъур. faqlu hezeb beTeralda $anib bugeb felmu - beTer hezeb qarqalayalda ;urab Tavur. 260. ГIакълу гьечIеб къаркъала – къебелъухъ лълъадаричIеб нус. faqlu hezeb qarqala - qebe;u] :adarizeb nus. 261. ГIакълу гьечIеб гьавали гьаваялда хьвадула. faqlu hezeb hawali hawayalda %wadula. 262. ГIакълу гьечIев «гIакъил», бо гьечIев «ццевехъан». faqlu hezew «faqil», bo hezew «Cewe]an» 263. ГIакълу гьечIев васассдасса гьевги хун гьабураб бахъухъ лълъикIаб. faqlu hezew wasaSdaSa hewgi [un haburab ba]u] :ijab. 264. ГIакълу гьечIевгIан чи мекъав вукIуневила. faqlu hezewfan xi meqaw wujunewila. 265. ГIакълу гьечIей бика – рахь гьечIеб гIака. faqlu hezey bika - ra% hezeb faka. 266. ГIакълу гьечIел данде чIвагеги, гIажал щварал цадахъ ккогеги. faqlu hezel dande zwagegi, fa$al &waral cada] Kofogegi. 267. ГIакълу гьечIессе гIакълу кьоге. faqlu hezeSe faqlu poge. 268. ГIакълу гьечIессул берал гIемер гIодулел. faqlu hezeSul beral femer fodulel. 269. ГIакълу гьикъизе херав чи гьечIони, хераб хIохьода гьикъе. faqlu hiqi#e [eraw xi hezoni, [erab \o%oda hiqe. 270. ГIакълу гIемерассул калам дагьаб. faqlu femeraSul kalam dahab. 271. ГIакълу гIолеб гьечIони, ганчIида гьикъунги, гьикъичIого тоге. faqlu foleb hezoni, ganzida hiqungi, hiqizogo toge. 272. ГIакълу дагьал, цIцIалукагътал щварал жал рихьулахха, дир лъимал, нуж! (Ххунзахъа Аталазул Катуралълъ абурал кицилъун лIугьарал рагIаби). faqlu dahal, ~alukavtal &waral $al ri%ula{a, dir ;imal, nu$! ({un#a]a atala#ul katura: abural kici;un /uharal rafabi). 273. ГIакълу дагьассул мацIцI кIудияб. faqlu dahaSul ma~ judiyab. 274. ГIакълу дагьассул рагIи гIемераб. faqlu dahaSul rafi femerab. 275. ГIакълу заргIанав – гIамал зобгIанав. faqlu #arfanaw - famal #obfanab. 276. ГIакълу – къокъаб, чIанда – ххалатаб. faqlu - qoqab, zanda - {alatab. 277. ГIакълу къокъассул мацIцI ххалатаб. faqlu qoqaSul ma~ {alatab. 278. ГIакълу кьеги къвачIа цIун, къвачIа кьеги гIарцул цIун. faqlu pegi qwaza `un, qwaza pegi farcul `un. 279. ГIакълу ресалълъ малълъулеб. faqlu resa: ma:uleb. 280. ГIакълу саналI гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu sana/ gurebila bujuneb, boTro/ila. 281. ГIакълу тIагърикь гуребила букIунеб, ботIролIила. faqlu Tavrip gurebila bujuneb, boTro/ila. 282. ГIакълу тIатине ссабруги кьеги, ссабру алжаналълъул кIул букIин лъазе гъваридаб пикруги кьеги. faqlu Tatine Sabru pegi, Sabru al$ana:ul jul bujin ;a#e vwaridab _ikrugi pegi. 283. ГIакълу – ццебе, ццин – нахъе. faqlu - Cebe, Cin - na]e. Цо росулI гIумру гьабулел рукIанила эбелги васги. Ххеххгого россги хун, гьев васассе гIумру бичарай гIадан йикIанила эбел. Балугълъиялде вас вахиндал, чIчIужу ячине йигин, дир вас, диеги кумек букIинеян лIугьанила эбел. Вас разилъулев вукIинчIила. Эбелни тIасса йичIичIелълъул, цо релълъаралда рекъараб бакIги тIасса бищун, чIчIужуги ячанила, бертинги гьабунила. Гьедин дагьал моцIцIал анила. co rosu/ fumru habulel rujanila ebelgi wasgi. {e{gogo roSgi [un, hew wasaSe fumru bixaray fadan yijanila ebel. baluv;iyalde was wa[indal, Zu$u yaxine yigin, dir was, diyegi kumek bujineyan /uhanila ebel. was ra#i;ulew wujinzila. ebelni TaSa yizize:ul, co re:aralda reqarab bajgi TaSa bi&un, Zu$ugi yaxanila, bertingi habunila. hedin dahal mo~al anila. Цо къоялълъ, сапаралдасса вуссиндал, гьессда эбелалълъул берал риччун рихьанила. Щиб-кинилан цIеххедал, щибго гьечIин, херал руччабазул берал чваххулин, гьедин батилилан, тIасса вихьизавунила гьелълъ вас. КIиабилеб къоялълъги гьединго кканила. Щаклъун васасс ххал ккунила. Эбелалълъ цо абулила, нусалълъ анцIго гIезабулила… co qoya:, sa_araldaSa wuSindal, heSda ebela:ul beral riXun ri%anila. &ib-kinilan `e{edal, &ibgo hezin, [eral ruXaba#ul beral xwa{ulin, hedin batilin, TaSa wi%i#awunila he: was. jiabileb qoya:gi hedin Kanila. &ak;un wasaS {al Kunila. ebela: co abulila, nusa: an`go fe#abulila... Гьа, гьадинищхха иш букIарабилан, ццин бахъанила васассул. Дицца дуда абунин дие лълъади ячунгейилан, дуццаго ячанин, гьанже лълъикIго рукIайин, дун нужеда тIокIав вихьулариланги абун, унаго-унаго вас рикIкIаде, цо базаргабазул росулIе щванила. Гьенив цо бечедав базарганасс жиндирго ххамил тукада вичаризе тIамунила. Гьедин анила чанго сон. ha, hadini&{a i^ bujarabilan, Cin ba]anila wasaSul. diCa duda abunin diye :adi yaxungeyila, duCago yaxanin, han$e :ijgo rajayin, dun nu$eda Tojaw wi%ularilangi abun, unago-unago was riJade, co ba#argaba#ul rosu/e &wanila. heniw co bexedaw ba#arganaS $indirgo {amil tukada wixari#e Tamunila. hedin anila xango son. Цо къоялълъ базарганассда гьав, кIалдиб полопги бан, квешго лIугьун ватанила. Щиб-кинилан гьикъидал, валагьин, эбелги ракIалде щванин, гьелълъ тамахлъизе гьавунилан бицанила. co qoya: ba#arganaSda haw, jaldib _olo_gi ban, kwe^go /uhun watanila. &ib-kinilan hiqidal, walahin, ebelgi rajalde &wanin, he: tama[;i#e hawunilan bicanila. «Рокъове тIад вуссине бокьиларищ дуе?» – ян цIехханила базарганасс. Бокьилаанилан жаваб кьунила гьассги. РекIине чуги кьунила, базе ярагъги кьунила. ЛълъикIаб бихьун ххамил ххулжалги цIезарунила. «Дуда тIад вуссине ракIалде ккани, эбелги лълъадиги цадахъ рачун, гьанивеги вачIа. Сордо кIудияссул гIакълуги цIцIикIкIарабилан абулелълъул, цо дихъги гIенеккеян, - абунила базарганасс, - росулIе щвезе рес букIаго, къватIивги чIчIоге, росу рикIкIад букIин лъалаго, къасси нухдаги вахъунге. Гьоболассда къваригIел гьечIеб жоги цIеххоге, ццин нахъе ккезабуни, мун мекъссаги ккеларо. Гьанже дуе нух битIаги», – ян гьессул квер босанила. «roqowe Tad wuSine bopilari& duye?» - yan `e{anila ba#arganaS. bopilaanilan $awab punila haSgi. rejine xugi punila, ba#e yaravgi punila. :ijab bi%un {amil {ul$algi `e#arunila. «duda Tad wuSine rajalde Kani, ebelgi :adigi cada] raxun, haniwegi waza. sordo judiyaSul faqlugi ~iJarabilan abule:ul, co di]gi feneKeyan, - abunila ba#arganaS, - rosu/e &we#e res bujago, qwaTiwgi Zoge, rosu riJad bujin ;alago, qaSi nu[dagi wa]unge. hobolaSda qwarifel hezeb $ogi `e{oge, Cin na]e Ke#abuni, mun meqSagi Kelaro. han$e duye nu[ biTagi», - yan heSul kwer bosanila. Гьедин гьасс ватIаналде сапар бухьанила. Гьессда нухда цадахъ кканила, варанабазда лъун гIемераб къайи-къоногун, гьеб бичизе унел базаргаби. ЛълъикIго ссваканги рукIун, сордоги щолеб букIун, цо ссанагIатаб бакIалда рещтIине ракIалде кканила къайицадахъазда. Гьасс абунила, жинда гьабзазул хIапиги хIелказул гIегIедиги рагIанин, гIагардегIан росу батиялда щаклъи гьечIин, гьанир рещтIун лълъикI гурилан. Васассул гIакълуялълъухъ гьел гIенеккичIила, гьенирго чIчIанила. hedin haS waTanalde sa_ar bu%anila. heSda nu[da cada] Kanila, waranaba#da ;un femerab wayi-qonogun, heb bixi#e unel ba#argabi. :ijgo Swakan rujun, sordogi &oleb bujun, co Sanafatab bajalda re&Tine rajalde Kanila qayicada]a#da. haS abunila, $inda hab#a#ul \a_igi \elka#ul fefedigi rafanin, fagardefan rosu batiyalda &ak;i hezin, hanir re&Tun :ij gurilan. wasaSul faqluya:u] hel feneKizila, henirgo Zanila. Вас росулIе вилълъанила. Саламги кьун, росдал годекIаниве щванила. Рокъо-рокъоре гIадамалги ун, цо чи ххутIанила, кагътида тIад лъураб гьанал кесекги кодоб ккун, гьенивго. Гьобол вугищан гьикъанила гьесс васассда. ГьечIилан гьессги жаваб кьунила. ХIинкъиларев ватани, дида цадахъ вилълъаян абунила гьев чиясс. Щай хIинкъулев, мунги дунго гIадав гIадан гурищилан, ххадуб чуги цIцIан, гьавги гьессда ххадув анила. was rosu/e wi:anila. salamgi pun, rosdal godejaniwe &wanila. roqo-roqore fadamalgi un, co xi {uTanila, kavtida Tad ;urab hanal kesekgi kodob Kun, heniwgo. hobol wugi&an hiqanila heS wasaSda. hezilan heSgi $awab punila. \inqilarew watani, dida cada] wi:ayan abunila hew xiyaS. &ay \inqulew, mungi dungo fadaw fadan guri&ilan, {adub xugi ~an, hawgi heSda {aduw anila. Азбаралълъуре лIугьиндал, гьой гIадин раххссидаги бан, хIапулей йигила чIчIужугIадан. БетIергьанчиясс гьей раххссидасса йичанила. Жанире щванила. Таххида тIад, гIадан гIадин, бегун бугила гьой. Гъой чIчIужуялълъ гьоболассул чодуе кIалцIи-ххерги банила. Доб гьанги белъун, ххинкIалги гьарунила, квенги гьазда ццебе лъунила. Цинги рукъалълъул бетIергьанасс чIчIужугIадан йикIаралълъуйго юхьанила. Ххадур кIиялгоги квананила, ххутIараб ракьа-макъарги чуриги дой чIчIужуялълъеги кьунила. a#bara:ure /uhindal, hoy fadin ra{Sidagi ban, \a_uley yigila Zu$ufadan. beTerhanxiyaS hey ra{SidaSa yixanila. $anire &wanila. ta{ida Tad, fadan fadin, begun bugila hoy. voy Zu$uya: hobolaSul xoduye jal`i-{ergi banila. dob hangi be;un, {injalgi harunila, kwengi ha#da Cebe ;unila. cingi ruqa:ul beTerhanaS Zu$ufadan yijara:uygo yu%anila. {adur jiyalgogi kwananila, {uTarab rapa-maqargi xurigi doy Zu$uya:egi punila. Къасси макьуги щвечIила васассда, кин букIаниги хIал лъазеги течIила, радал вахъун нухда ине къачIанила. Додинго кваназеги гьавун, инехъин вукIарав вас гьоболасс тIад вуссине гьавунила. - Дуда гьаниб щибго гIажаиблъи гьабизе жого бихьичIищ? – ан гьикъанила. - Валлагь, дуда берцин бихьараб гуреяб, дида щибго гIажаибаб жо бихьичIо, – ян чIчIанила гьав. - Гьанже дида ххадув вачIа, – ян цо гвенд бихьизабунила гьасс гьоболассда. Цо рахъалде бутIрул, цоги рахъалде къаркъалаби ран ругила чIварал чагIазул. – КъваригIел гьечIеб жо цIеххон вукIарабани, мунги гьазда асскIов вукIинаан. Мун цIцIодорав чи вихьула, дицца дуда кинабго бицина. qaSi mapugi &wezila wasaSda, kin bujanigi \al ;a#egi tezila, radal wa]un nu[da ine qazanila. dodingo kwana#egi hawun, ine]in wujaraw was hobolaS Tad wuSine hawunila. - duda hanib &ibgo fa$aib;i habi#e $ogo bi%izi&? - an hiqanila. - walah, duda bercin bi%arab gureyab, dida &ibgo fa$aibab $o bi%izo, - yan Zanila haw. - han$e dida {aduw waza, - yan co gwend bi%i#abunila haS hobolaSda. co ra]alde buTrul, cogi ra]alde qarqalabi ran rugila zwaral xafa#ul. - qwarifel hezeb $o `e{on wujarabani, mungi ha#da aSjow wujinaan. mun ~odoraw xi wi%ula, diCa duda kinabgo bicina. Гьагъай гIадан дир яццгIал йиго. Ниж гьитIинго рукIаго, хвана нижер эбел-эмен. Гьелълъул эбелалълъ холелълъул дида гьарана кIудияй гIезегIан гьелълъул тIалаб гьабейила, ваццги яццги гIадинги рукIайилан. КIудиял гIедалги, бокьани, дуего тейила, бокьичIони, абун вачIарассе кьейила. Абун чи вачIиндал, дицца гьелда гьикъана - «Мун гьессиейищ кьелей, диегойищ телей?» – ян. «Дуего те», – ян абуна гьелълъ. Диццаги гьедин гьабуна. havay fadan dir yaCfal yigo. ni$ hiTingo rujago, [wana ni$er ebel-emen. he:ul ebela: [ole:ul dida harana judiyay fe#efan he:ul Talab habeyila, waCgi yaCgi fadin rujayila. judiyal fedalgi, bopani, duyego teyila, bopizoni, abun wazaraSe peyila. abun xi wazindal, diCa helda hiqana - «mun heSiyeyi& peley, diyegoyi& teley?» - yan. «duyego te», - yan abuna he:. diCagi hedin habuna. Дун кьижун ккаравго, гьей къватIие уней йикIун йиго. Щаклъун цо сордоялълъ ххадуб ххал ккуна. Росу рагIалда бугеб цо рокъое тIерхьун гьейги ана, ххадувго дунги вилълъана. dun pi$un Karawgo, hey qwaTiye uney yijun yigo. &ak;un co sordoya: {adub {al Kuna. rosu rafalda bugeb co roqoye Ter%un heygi ana, {aduwgo dungi wi:ana. Дицца нуцIцIа ричIеян ахIана. РичIизе рахараб гурилан ахIана жаниссан. Бараб малалълъ нуцIцIаги речIчIизабун, дун жаниве кIанцIана. Жанив вукIарав дида тIад речIчIана. Гьессдасса дун къолев вукIана. Дицца гьелда гьарана дие дагьаб кумек гьабеян. Гьелълъни гьабичIо. Дида ххадуб бачIун букIун буго гьаб гьой. РечIчIун тIадгун, гьелълъ гьев тIутIун вана. Гьеб къоялдасса нахъе дицца гьей раххссида бана, гьелълъул бакIалда гьой рокъобеги бачана. ЯццгIал йикIун, чIвазеги кIвечIо, – ян лIугIизабунила гьесс жиндирго ххабар. diCa nu~a rizeyan a\ana. rizi#e ra[arab gurilan a\ana $aniSan. barab mala: nu~agi reZi#abun, dun $aniwe jan`ana. $aniw wujaraw dida Tad reZana. heSdaSa dun qolew wujana. diCa helda harana diye dahab kumek habeyan. he:ni habizo. dida {adub bazun bujun bugo hab hoy. reZun Tadgun, he: hew TuTun wana. heb qoyaldaSa na]e diCa hey ra{Sida bana, he:ul bajalda hoy roqobe baxana. yaCfal yijun, zwa#egi jwezo, - yan /ufi#abunila heS $indirgo {abar. Вас нухда вахъанила. Дол цадахъ рукIарал базаргаби, хъачагъалги тIаде кIанцIун, кодосса къайиги бахъун, ратанила. Щванила гьав жиндирго росулIе. Рукъалълъул кIалтIеги ун, гордухъан жаниве валагьанила. Дой гьассул чIчIужуги йигила гIодой йикIун. Гьелълъул накабазда бетIерги лъун, кьижун цо гIолохъанчиги вугила, гьессул бетIер лълъухьулей гьейги йигила. was nu[da wa]anila. dol cada] rujaral ba#argabi, ]axavalgi Tade jan`un, kodoSa qayigi ba]un, ratanila. &wanila haw $indirgo rosu/e. ruqa:ul jalTegi un, gordu]an $aniwe walahanila. doy haSul Zu$ugi yigila fodoy yijun. he:ul nakaba#da beTergi ;un, pi$un co folo]anxigi wugila, heSul beTer :u%uley heygi yigila. Цин ххиял гьабунила, бахъун хханжаргун, жаниве кIанцIизе, нахъеги ургъанила, базарганассул гIакълу гIадахъ босиялълъ гьанжелъагIанги мекъи ккечIин, гьаб нухалълъги, гIакълу ццебе, ццин нахъе ккезабун лълъикIилан кканила. Гьав эбелалълъухъе вилълъанила. Гьобол вокьиларищан, жаниве лIугьанила. Валлагь, вокьилинхха, нусго вугонигиян, херай разиго данде яхъанила. cin {iyal habunila, ba]un {an$argun, $aniwe jan`i#e, na]egi urvanila, ba#arganaSul faqlu fada] bosiya: han$e;afangi meqi Kezin, hab nu[a:gi, faqlu Cebe, Cin na]e Ke#abun :ijanilan Kanila. haw ebela:u]e wi:anila. hobol wopilari&an, $aniwe /uhanila. walah, wopilin{a, nusgo wugonigiyan, [eray ra#igo dande ya]anila. Квана-гьекъон вахъаравго, гьав цIеххолданила, дур лъимал-чагIиго гьечIищин, нахъе щал ругелилан. Гьалълъги ккараб жо бицанила, васги вукIанин жиндир. Цо пайда гьечIеб кIалъай жиндирги нусалълъулги ккунилан, къватIиве арав гьевги тIокIав тIад вуссинчIила. ГIемер мехх иналде нусалълъ месед гIадав васги гьавунила. Гьанже гьез тIалаб-агъазги гьабун, жийги йигила, васассулги щибго ххабар лъачIила. kwana-heqon wa]arawgo, haw `e{oldanila, dur ;imal-xafigo hezi&an, na]e &al rugelilan. ha:gi Karab $o bicanila, wasgi wujanin $indir. co _ayda hezeb ja;ay $indirgi nusa:ulgi Kunilan, qwaTiwe araw hewgi Tojaw Tad wuSinzila. femer me{ inalde nusa: mesed fadaw wasgi hawunila. han$e he# Talab-ava#gi habun, $iygi yigila, wasaSulgi &ibgo {abar ;azila. Гьеле гьев вас жив вугилан, эбелалда гьавги ххурхханила. Гьеб меххалдасса нахъе эбелги, васги, хъизанги цадахъ талихIаб гIумруялда ругила. hele hew was $iw wugilan, ebelalda hawgi {ur{anila. heb me{aldaSa na]e ebelgi, wasgi, ]i#angi cada] tali\ab fumruyalda rugila. 284. ГIакълу цIцIикIкIарассул гIамал гьитIинаб. faqlu ~iJaraSul famal hiTinab. 285. ГIакълу цIцIикIкIарассул нигат бацIцIадаб. faqlu ~iJaraSul nigat ba~adab. 286. ГIакълуги пагьмуги хIуруцца баххчулареб. faqlugi _ahmugi \uruCa ba{xulareb. 287. ГIакълуялда къуват бащалъулеб жо гьечIебила. faqluyalda quwat ba&a;uleb $o hezebila. 288. ГIакълуялълъул бетIергьан хIасад гьечIеб вукIуна. faqluya:ul beTerhan \asad hezeb wujuna. 289. ГIакълуялълъул эбел – калам дагь гьаби, дарабазул эбел – квен дагь гьаби. faqluya:ul ebel - kalam dah habi, daraba#ul ebel - kwen dah habi. 290. ГIакъуба бихьичIесс къо хIехьолареб. faquba bi%izeS qo \e%olareb. 291. ГIала бекерун цIцIар босиларо, цIцIуяй гьаюдун рукъ бечелъиларо. fala bekerun ~ar bosilaro, ~uyay hayudun ruq bexe;ilaro. 292. ГIала – чармил, чу – маххул. fala - xarmil, xu - ma{ul. 293. ГIалимчи гIалимчияссда лъала, гIакъил гIакъилассда лъала, гIарцул бацIцIалъи къебедассда лъала. falimxi falimxiyaSda ;ala, faqil faqilaSda ;ala, farcul ba~a;i qebedaSda ;ala. 294. ГIалимзабазда асскIов – жагьилчи, жагьилзабазда асскIов – гIалимчи. falim#aba#da aSjow - $ahilxi, $ahil#aba#da aSjow - falimxi. 295. ГIалимчи вукIине кколев гьулчун бачIунеб ралъад гIадавги щун бачIунеб гIор гIадавги. falimxi wujine Kolew hulxun bazuneb ra;ad fadawgi &un bazuneb for fadawgi. 296. ГIалимчи лъалев живго гIадав гIалимчияссда, устар лъалев живго гIадав устарассда. falimxi ;alew $iwgo fadaw falimxiyaSda, ustar ;alew $iwgo fadaw ustaraSda. 297. ГIалимчиги вукIунев, цо-цо цIцIалунчиги вукIунев. falimxigi wujunew, co-co ~alunxigi wujunew. 298. ГIалихъиличил хъиртIеги ине бегьула яс гьаризе, Хъарагищил гьинтIеги ине бегьула. fali]ilixil ]irTegi ine behula yas hari#e, ]aragi&il hinTegi ine behula. 299. ГIалххуда мокъокъги къороллъугеги, мокъокъил тIанчIиги бессдаллъугеги. fal{uda moqoqgi qorol;ugegi, moqoqil Tanzigi beSdal;ugegi. 300. ГIалххудаги берал ругел, къададаги гIундул ругел. fal{udagi beral rugel, qadadagi fundul rugel. 301. ГIалххул чанги цIунулеб жибго жинццаго, гIонкIкIол тIинчIги цIунулеб жибго жинццаго. fal{ul xangi `unuleb $ibgo $inCago, fonJol Tinzgi `unuleb $ibgo $inCago. 302. ГIамал бихьун хIалтIе, хIал бихьун хьвагIе. famal bi%un \alTe, \al bi%un %wafe. 303. ГIамал гьечIев гIалимчи – бакъ гьечIеб рагIад. famal hezew falimxi - baq hezeb rafad. 304. ГIамал зобгIан кIудияссда гIакълу заргIан гурони букIунаребила. famal #obfan judiyaSda faqlu #arfan guroni bujunarebila. 305. ГIамал къадаразе гьабураб лълъикIлъи – дуйго квешлъиялълъе батулеб бакIлъи. famal qadara#e haburab :ij;i - duygo kwe^;iya:e batuleb baj;i. 306. ГIамал кIудияв, гьунар гьитIинав. famal judiyaw, hunar hiTinaw. 307. ГIамал кIудияв чи – гIадамазул тушман, лIар бегIераб хIайван – хIайваназул тушман. famal judiyaw xi - fadama#ul tu^man, /ar beferab \aywan - \aywana#ul tu^man. 308. ГIамал кIудияссул гIакълу гьитIинаб. famal judiyaSul faqlu hiTinab. 309. ГIамал лълъикIаб чода нахъа-ццере рекIунел. famal :ijab xoda na]a-Cere rejunel. 310. ГIамал рекъечIеб ригьиналдассаги цIунаги, цIуна-къай гьечIеб хъизаналдассаги цIунаги. famal reqezeb rihinaldaSagi `unagi, `una-qay hezeb ]i#analdaSagi `unagi. 311. ГIамал рекъонила къадарги хъвалеб. famal reqonila qadargi ]waleb. 312. ГIамал рекъолареб къадаралдасса, къадарги щун хабалIе инго лълъикI. famal reqolareb qadaraldaSa, qadargi &un [aba/e ingo :ij. 313. ГIамалалда рекъарабила гIумруги букIунеб. famalalda reqarabila fumrugi bujuneb. 314. ГIамалалълъ басра гьавурав асс-къоялълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw aS-qoya: jodo hawularew. 315. ГIамалалълъ басра гьавурав насибалълъ кIодо гьавуларев. famala: basra hawuraw nasiba: jodo hawularew. 316. ГIамаликъаб цIцIуяб жоялдассаги цIунаги, цIцIад гьечIеб рииялдассаги цIунаги. famaliqab ~uyab $oyaldaSagi `unagi, ~ad hezeb riiyaldaSagi `unagi. 317. ГIанабазда гIи хьихьуларо, гъалазда чу бухьунаро. fanaba#da fi %i%ularo, vala#da xu bu%unaro. 318. ГIанкIкI гьойдасса хIинкъарабила, гьой гIанкIкIидасса хIинкъарабила. fanJ hoydaSa \inqarabila, hoy fanJidaSa \inqarabila. 319. ГIанкIкI кколареб жоялълъ цер кквеларо. fanJ Kolareb $oya: cer Kwelaro. 320. ГIанкIкI чIвазе унелълъул, бацI чIвазе гIадин айила. fanJ zwa#e une:ul, ba` zwa#e fadin ayila. 321. ГIанкIкIгун вагъизе, гъалбацIгун вагъизе гIадин къачIай. fanJgun wavi#e, valba`gun wavi#e fadin qazay. 322. ГIанкIкIида гIарада речIчIулареб, чIчIотIоде ххвалчен хьвагIулареб. fanJida farada reZulareb, ZoTode {walxen %wafulareb. 323. ГIанкIкIил бихьинлъи-цIцIулъи хханассда гурони лъаларебила. fanJil bi%in;i-~u;i {anaSda guroni ;alarebila. Гьалълъул магIна гуро ххан гIакъилав вугилан, ялъуни гьессул лъай цIцIикIкIараб бугилан абураб. МагIна буго, гьесс бихьинабан абураб бихьинабан тезе ккола, цIцIуябан абураб цIцIуябан тезе ккола, гьессие бокьаралда ххадур рилълъинчIого чара гьечIоян абураб. ХIакъикъаталда ххалкъалълъ жидедаго гьоркьов ххан маххссара-ххочIалълъе гьавулев вуго. ha:ul mafna guro {an faqilaw wugilan, ya;uni heSul ;ay ~iJarab bugilan aburab. mafna bugo, heS bi%inaban aburab bi%inaban te#e Kola, ~uyaban aburab ~uyaban te#e Kola, heSiye boparalda {adur ri:inzogo xara hezoyan aburab. \aqiqatalda {alqa: $idedago horpow {an ma{Sara-{oza:e hawulew wugo. 324. ГIанкIкIие хIетI кьалаб, мокъокъие кIал кьалаб. fanJiye \eT palab, moqoqiye jal palab. 325. ГIанкIкIицца чIвараб цIцIум, цIцIецца ккураб бацI. fanJiCa zwarab ~um, ~eCa Kurab ba`. 326. ГIанкIкIиццаги беццулеб жиндирго рукIун, гIонкIкIоццаги беццулеб жиндирго каратI. fanJiCagi beCuleb $indirgo rujun, fonJoCagi beCuleb $indirgo karaT. 327. ГIанкIу бикъарасс оцги бикъулебила. fanju biqaraS ocgi biqulebila. 328. ГIанкIу кинаб бугониги, хханил тIагIам цо букIунеб. fanju kinab bugonigi, {amil Tafam co bujuneb. 329. ГIанкIу къинлъулареб хоно гъоркь течIони, хIалтIуде гъира балареб рахъи гьечIони. fanju qin;ulareb [ono vorp tezoni, \alTude vira balareb ra]i hezoni. 330. ГIанкIу холеб хъирщадулаго, гIадан холев бечелъизе чIучIадулаго. fanju [oleb ]ir&adulago, fadan [olew bexe;i#e zuzadulago. 331. ГIанкIу чIчIегIераб бугониги, хоно хъахIаб гьабула. fanju Zeferab bugonigi, [ono ]a\ab habula. 332. ГIанкIудал мокъида мокъокъ чIчIоларо, хIамил руссуналда чу бухьунаро. fanjudal moqida moqoq Zolaro, \amil ruSunalda xu bu%unaro. 333. ГIанкIудал ханазул тIамуниги лал бокъунарев. fanjudal [ana#ul Tamunigi lal boqunarew. 334. ГIанкIуялълъ квегъулеб хIелеко. fanjuya: kwevuleb \eleko. 335. ГIанкIуялълъ хъирщи таниги, чиясс ругьунаб гIамал толареб. fanjuya: ]ir&i tanigi, xiyaS ruhunab famal tolareb. 336. ГIантаб рагIи тIад буссун дудаго речIчIулеб. fantab rafi Tad buSun dudago reZuleb. 337. ГIантаб суалалълъе жавабги гIантаб букIуна. fantab suala:e $awabgi fantab bujuna. 338. ГIантаб томеналдасса цIцIодораб шагьи лълъикIаб. fantab tomenaldaSa ~odorab ^ahi :ijab. 339. ГIантав бахIарчияссдасса хIинкъарав цIцIодор лълъикIав. fantaw ba\arxiyaSdaSa \inqaraw ~odor :ijaw. 340. ГIантав вукIа абе, гIадалав вукIа абе – цого жо. fantaw wuja abe, fadalaw wuja abe - cogo $o. 341. ГIантав гьудулассдасса цIцIодорав тушманго лълъикIавила. fantaw hudulaSdaSa ~odoraw tu^mango :ijila. 342. ГIантал чагIи гьечIони, гIакъилассе боцIцIи кисса щвелеб? fantal xafi hezoni, faqilaSe bo~i kiSa &weleb? 343. ГIантасс лълъади какулейила, квешасс гьудул какулевила. fantaS :adi kakuleyila, kwe^aS hudul kakulewila. 344. ГIантассда цIеххезе кколареб, цIеххечIониги гьесс жинццаго бицунеб. fantaSda `e{e#e Kolareb, `e{ezonigi heS $inCago bicuneb. 345. ГIантассе – бухъарабго хоб, чIварабго лахIту. fantaSe - bu]arabgo [ob, zwarabgo la\tu. 346. ГIантассе кици тIамуни, гьелълъул магIнаги бицине кколебила. fantaSe kici Tamuni, he:ul mafnagi bicine Kolebila. 347. ГIаракъи – ургьибе, гIакълу – гьаваялде. faraqi - urhibe, faqlu - hawayalde. 348. ГIаракъидул шишаялълъ борлIулареб къед гьечIебила. faraqidul ^i^aya: bor/ulareb qed hezebila. 349. ГIарахъмагIардаги ссверун ралагье (ссверухъе ралагьичIого, рагIи кьвагьун биччаге). fara]mafardagi Swerun ralahe (Sweru]e ralahizogo, rafi pwahun biXage). 350. ГIарац балагьизе бигьаяб, кквезе захIматаб жойила. farac balahi#e bihayab, Kwe#e #a\matab #oyila. 351. ГIарац бекьани, месед бижулеб. farac bepani, mesed bi$uleb. 352. ГIарац бугев гуревила бечедав, гIакълу бугевила. farac bugew gurewila bexedaw, faqlu bugewila. 353. ГIарац бугессул рилълъингицин батIияб. farac bugeSul ri:ingicin baTiyab. 354. ГIарац бугони, магIардаги ах гьабула. farac bugoni, mafardagi a[ habula. 355. ГIарац гьечIессе буххча ссундуе, нич гьечIессе ххабар ссундуе? farac hezeSe bu{xa Sunduye, nix hezeSe {abar Sunduye? 356. ГIарац гьечIев чияссул чвантил кIалтIу къваридаб. farac hezew xiyaSul xwantil jalTu qwaridab. 357. ГIарац гьечIолъи – гIагарал чагIи гьечIолъи. farac hezoni - fagaral xafi hezoni. 358. ГIарац гIемерлъиялдасса гьудулзаби гIемерлъи лълъикIаб. farac femer;iyaldaSa hudul#abi femer;i :ijab. 359. ГIарац дагьаб бугониги гIола, гIемерлъанищ, гьелълъие гIей гьечIеб. farac dahab bugonigi fola, femer;ani&, he:iye fey hezeb. 360. ГIарац жо гуро, живго чи вукIине ккола. farac $o guro, $iwgo xi wujine Kola. 361. ГIарац кьавуцца кварав (ГIарцуда кьаву чIварав). farac pawuCa kwaraw (farcuda pawu zwaraw). 362. ГIарац кьун босараб жойилан, жугьтIицца ссапун кварабила. farac pun bosarab $oyilan, $uhTiCa Sa_un kwarabila. 363. ГIарац кIалъалеб меххалълъ, ритIухълъи буцIцIун чIчIола. farac ja;aleb me{a:, riTu];i bu~un Zola. 364. ГIарац рикIкIун босе, ххам борцун босе. farac riJun bose, {am borcun bose. 365. ГIарац тIагIинабизеги, чу хIалакъ гьабизеги – бигьаяб жо. farac Tafinabi#egi, xu \alaq habi#egi - bihayab $o. 366. ГIарац хъирис буго, букаричIого букIунаро. farac ]iris bugo, bukarizogo bujunaro. 367. ГIарац-меседалълъул багьа гьабизе бегьула, лълъикIаб рагIул багьа гьабун бажаруларо. farac-meseda:ul baha habi#e behula, :ijab raful baha habun ba$arularo. 368. ГIаркьел бекунилан, гъветI бакъвалареб. farpel bekunilan, vweT baqwalareb. 369. ГIарцул горал раниги, гуржи ганжалъиларо, горал рахъун лъуниги, хъирмил багьа хвеларо. farcul goral ranigi, gur$i gan$a;ilaro, goral ra]un ;unigi, ]irmil baha [welaro. 370. ГIарцул гьудуллъиги гьудуллъи гуребила, боцIцIул ригьинги ригьин гуребила. farcul hudul;igi hudul;i gurebila, bo~ul rihingi rihin gurebila. 371. ГIарцул квешлъи – гьечIолъи, гьанал квешлъи – хIалакълъи. farcul kwe^;i - hezo;i, hanal kwe^;i - \alaq;i. 372. ГIарцул кисаялдасса кIудияв чияссул гIакълу лълъикIаб. farcul kisayaldaSa judiyaw xiyaSul faqlu :ijab. 373. ГIарцул ссахIалдасса кIудияв чияссул гIакълу бергьунебила. farcul Sa\aldaSa judiyaw xiyaSul faqlu berhunebila. 374. ГIарцуцца бацIцIуна, боцIцIуцца чурула. farcuCa ba~una, bo~uCa xurula. 375. ГIарцуцца хханассул лагъги лагъассул хханги гьавулев. farcuCa {anaSul lav;i lavaSul {angi hawulew. 376. ГIатI бугони – ххинкIал, ххам бугони – ретIел. faT bugoni - {injal, {am bugoni - reTel. 377. ГIатI лълъамалъи – чохьол талихI. faT :ama;i - xo%ol tali\. 378. ГIатIада хIучч хъвалев, ххинкIазда гIуж балев. faTada \uX ]walew, {inja#da fu$ balew. 379. ГIатIалълъ лъурай гIунарай, гIазулI лъурай йорчIарай (гIуничIей). faTa: ;uray funaray, fa#u/ ;uray yorzaray (funizey). ХIинкьи букIун, эбелалълъ жиндирго яс гIатIалълъ яххчун йиго, бессдал яс, квачангIаги хвелародаян, гIазулI къазаюн йиго... \inqi bujun, ebela: $indirgo yas faTa: ya{xun yigo, beSdal yas, kwaxanfagi [welarodayan, fa#u/ qa#ayun yigo... 380. ГIатIго букIаго, кьуризе дидаги лъачIо, бакъвадго кьурулаго, къваркьан бекана (Хьопода кьуричIони, гIоркьида бекулеб). faTgo bujago, puri#e didago ;azo, baqwadgo purulago, qwarpan bekana (%o_oda purizoni, forpida bekuleb). 381. ГIатIго цIцIачIеб ботIил чIор, бучIулI цIцIани, бекула, борчIулI квер щвечIеб кеке хIасралъуда ххутIула. faTgo ~azeb boTil zor, buzu/ ~ani, bekula, borzu/ kwer &wezeb keke \asra;uda {uTula. 382. ГIатIиги тIатIиги – цого жо. faTigi TaTigi - cogo $o. 385. ГIатIидаб дунялалда кьечIеб талихI къваридаб хобалълъубги кьеларо. faTidab dunyalalda pezeb tali\ qwaridab [oba:ubgi pelaro. 386. ГIатIидал къоял ххеххго къокъунел, къваридал ун рахъунарел. faTidal qoyal {e{go qoqunel, qwaridal un ra]unarel. 387. ГIатIидассе кьурул нохъоги гIатIидаб, къваридассе тIолго дуниялги къваридаб. faTidaSe purul no]ogi faTidab, qwaridaSe Tolgo duniyalgi qwaridab. 388. ГIатIилъиялде ккани, къварилъи кIочон толеб. faTi;iyalde Kani, qwari;i joxon toleb. 389. ГIахьалаб гьойдасса нилIго бетIергьанаб кетого лълъикIила. fa%alab hoydaSa ni/go beTerhanab ketogo :ijila. 390. ГIачигъовулI вищарав, бакъанида реххарав (рехьед биххулI реххарав). faxivowu/ wi&araw, baqanida re{araw (re%ed bi{u/ re{araw). 391. ГIачиялълъе чу гъурай, чахъабалълъе росс гъурай. faxiya:e xu vuray, xa]aba:e roS vuray. 392. ГIачIрал гьаналги гьагIуйила, бачил гьаналги гьагIуйила. fazral hanalgi hafuyila, baxil hanalgi hafuyila. 393. ГIашилтIа Манташ гIадин. fa^ilTa manta^ fadin. Манташ вукIун вуго бечедав инссул вас, гьагав гIоркьилав. ГIолохъанлъиялде вахаралдасса нахъего тIеренаб дарайдул гвердилI реххулел рукIун руго Манташицца ххасалил кьварарал къоял. «Ххасало гвала ретIе, Манташ, риидал гвердилI вукIа!» – ян гIадамаз гIакълу кьураб меххалълъ, гьесс абулеб букIун буго ххасалил лъабго моцIцIалълъе гIоло Манташицца чIухIи гIодобе реххуларилан. Гьеб чIухIиялълъ Манташ нуха регIун вуго кIикъого соналълъул гIумруялде вахиналдего. manta^ wujun wugo bexedaw inSul was, hagaw forpilaw. folo]an;iyalde wa[araldaSa na]ego Terenab daraydul gwerdi/ re{ulel rujun rugo manta^iCa {asalil pwararal qoyal. «{asalo gwala reTe, manta^, riidal gwerdi/ wuja!» - yan fadama# faqlu purab me{a:, heS abuleb bujun bugo {asalil ;abgo mo~a:e folo manta^iCa zu\i fodobe re{ularilan. heb zu\iya: manta^ nu[a refun wugo joqogo sona:ul fumruyalde wa[inalde. Гьаб буго гIемерал магIарулазда гьоркьоб тIибитIун араб дандекквеялълъулаб кици. Кин, щиб хIалалда вугеван гьикъараб меххалълъ, тIассан борчIараб эркенлъиялда вугилан абураб магIнаялда, цо-цояз жаваб кьола ГIашилтIа Манташ гIадин вугилан. hab bugo femeral mafarula#da horpob TibiTun arab dandeKweya:ulab kici. kin, &ib \alalda wugewan hiqarab me{a:, TaSan borzarab erken;iyalda wugilan aburab mafnayalde, co-coya# $awab pola fa^ilTa manta^ fadin wugilan. 394. ГIащтIи хвезе ноцIцI гIадав, цIцIам гьечIеб чурпа гIадав. fa&Ti [we#e no~ fadaw, ~am hezeb xur_a fadaw. 395. ГIашура къваридаб, къурбан гIатIидаб. fa^ura qwaridab, qurban faTidab. 396. ГIашурадул моцIцIилан абула моцIцIрол соналълъул мухIарам моцIцIалде, къурбанаб моцIцIиланги абула зулхIижат моцIцIалде. Гьеб кIиябго моцIцIалда жаниб кколеб хис-басалълъул хIакъалълъулI буго кици. «МухIарам моцIцI кьерхадул, зулхIижат моцIцI роцIцIадул» абураб магIнаялдаги хIалтIизабула. fa^uradul mo~ilan abula mo~rol sona:ul mu\aram mo~olde, qurbanab mo~ilangi abula #ul\i$at mo~alde. heb jiyabgo mo~alda $anib Koleb [is-basa:ul \aqa:u/ bugi kici. «mu\aram mo~ per[adul, #ul\i$at mo~ ro~adul» aburab mafnayaldagi \alTi#abula. 397. ГIебуда зар баге, зазида хIетIе чIчIоге. febuda #ar bage, #a#ida \eTe Zoge. 398. ГIебуялдасса бегIераб жо – гIолохъанчияссул ракI, моххмоххидасса кьарияб жо – мегIер. febuyaldaSa beferab $o - folo]anxiyaSul raj, mo{mo{idaSa pariyab $o - mefer. 399. ГIебуялълъ гIебу борлIулареб. febuya: febu bor/ulareb. 400. ГIедал течIони, хведал толебила. fedal tezoni, [wedal tolebila. 401. ГIедал щарги чIвалеб, ккедал (щведал) чиги чIвалев. fedal &argi zwaleb, Kedal (&wedal) xigi zwalew. Ццебе, чабхъадул заманалда, Мусал ГIадалаван вукIун вуго цIцIар рагIарав ццевехъан. Чабхъад живги вачеян гьаризе арав цо гIолохъанчияссда гьев ватун вуго щар чIвалев. Cebe, xab]adul #amanalda, musal fadalawan wujun wugo ~ar rafaraw Cewe]an. xab]ad $iwgi waxeyan hari#e araw co folo]anxiyaSda hew watun wugo &ar zwalew. Дуцца, цIцIар рагIарав бахIарчиясс, щаргIаги щай чIвалебан гьикъараб меххалълъ, гьесс жаваб кьун буго. БахIарчи эбалълъе ясги вукIине кколев, ясалълъе россги вукIине кколев. ГIедал щарги чIвалеб нилIецца, ккедал чиги чIвалев нилIецца. duCa, ~ar rafaraw ba\arxiyaS, &arfagi &ay zwaleban hiqarab me{a:, heS $awab pun bugo. ba\arxi ebela:e yasgi wujine Kolew, yasa:e riSgi wujine Kolew. fedal &argi zwaleb ni/eCa, Kedal xigi zwalew ni/eCa. 402. ГIедал яс раса-цIцIалкIугун ягъулей. fedal yas rasa-~aljugun yavuley. 403. ГIедал яс россассе кье, яс йиго цIцIорол цIарагI. fedal yas roSaSe pe, yas yigo ~orol `araf. 404. ГIедал ясалълъе росс щваги, бокъиндал лалие гьури бачIаги. fedal yasa:e roS &wagi, boqindal laliye huri bazagi. 405. ГIедегIараб гважуцца беццаб когIо гьабулебила. fedefarab gwa$uCa beCab kofo habulebila. 406. ГIедегIараб гIанкIкI гьакицца кколеб. fedefarab fanJ hakiCa Koleb. 407. ГIедегIараб гIор ралъдахъе щолареб. fedefarab for ra;da]e &olareb. 408. ГIедегIун вачIарав гьобол гIедегIун уневила. fedefun wazaraw hobol fedefun unewila. 409. ГIедегIун гьабурабгIан, мурадалде щоларел. fedefun haburabfan, muradalde &olarel. 410. ГIедегIун хверхараб ххеххго биххулеб. fedefun [we[arab {e{go bi{uleb 411. ГIедегIунги гьабуге, гIададаги вукIунге. fedefungi habuge, fadadagi wujunge. 412. ГIей гьечIеб боцIцIиялдасса цIунаги. fey hezeb bo~iyaldaSa `unagi. 413. ГIейдал течIони, хвейдал толебила. feydal tezoni, [weydal tolebila. 414. ГIелалдего херлъарав, хвелалдего шапарав. felaldego [er;araw, [welaldego ^a_araw. 415. ГIелалълъ гIел ккола, кьералълъ кьер ккола. fela: fel Kola, pera: per Kola. 416. ГIелму асслу буго, пагьму кьучIчI буго, кьучIчIалда гурони къедги чIчIоларо. felmu aSlu bugo, _ahmu puZ bugo, puZalda guroni qedgi Zolaro. 417. ГIелму бигьаяб жояни, гIундулххалатиццаги гьабилаан. felmu bihayab $oyani, fundul{alatiCagi habilaan. 418. ГIелму бикъуларо, гIакълу бахъуларо. felmu biqularo, faqlu ba]ularo. 419. ГIелму бокьарассда макьу щоларо. felmu boparaSda mapu &olaro. 420. ГIелму бугев гIабдалги вукIунев, гIакълу бугев жагьилги ватулев. felmu bugew fabdalgi wujunew, faqlu bugew $ahilgi watulew. 421. ГIелму – гъветI, гIамал – пихъ. felmu - vweT, famal - _i]. 422. ГIелму гьечIеб ххалгIаталълъги лъай гьечIеб бетIералълъги чи алжаналълъуве вачинаро. felmu hezeb {alfata:gi ;ay hezeb beTera:gi xi al$ana:uwe waxinaro. 423. ГIелму гьечIев – рекъав, гIакълу гьечIев – беццав. felmu hezew - reqaw, faqlu hezew - beCaw. 424. ГIелму – гIакълуялълъул черхх. felmu - faqluya:ul xer{. 425. ГIелму гIодоб батулареб, гIакълу бичун босулареб. felmu fodob batulareb, faqlu bixun bosulareb. 426. ГIелму дагьав гIалимчи росугун къаццандула. felmu dahaw falimxi rosugun qaCandula. 427. ГIелму жавгьар буго, жагьлу загьру буго. felmu $awhar bugo, $ahlu #ahru bugo. 428. ГIелму – канлъи, жагьлу – бецIцIлъи. felmu - kan;i, $ahlu - be~;i. 429. ГIелму къарзалълъе кьолареб. felmu qar#a:e polareb. 430. ГIелму тIалаб гьабейила, киниялдассан байбихьун, лахIтуялде щвезегIан. felmu Talab habeyila, kiniyaldaSan baybi%un, la\tuyalde &we#efan. 431. ГIелму цIцIали – бигьаяб жо, гIадан лIугьин – захIматаб жо. felmu ~ali - bihayab $o, fadan /uhin - #a\matab $o. 432. ГIелмудал лълъалъ щвараб лъайги камилаб. felmudal :a; &warab ;aygi kamilab. 433. ГIакълудал нур гIураб гIадлуги лълъикIаб. faqludal nur furab fadlugi :ijab. 434. ГIелмуялдасса бергьараб жо – гIакълу. felmuyaldaSa berharab $o - faqlu. 435. ГIелмуялълъ гIакълу кьола, гIакълуялълъ пайда кьола. felmuya: faqlu pola, faqluya: _ayda pola. 436. ГIелмуялълъ гIодовегIанав чи тIадегIан гьавула, жагьиллъиялълъ тIадегIанав чи гIодовегIан гьавула. felmuya: fodowefanan xi Tadefan hawula, $ahil;iya: Tadefanaw xi fodowefan hawula. 437. ГIелмуялълъ лълъалъачIого, гIакълуялда тIегь балареб. felmuya: :a;azogo, faqluyalda Teh balareb. 438. ГIелмуялълъе къадаравгIан гIалимчияссул нух къваридаб. felmuya:e qadarawfan falimxiyaSul nu[ qwaridab. 439. ГIелмуялълъул бетIер – гIакълу, гIакълуялълъул бетIер – ссабру, ссабруялълъул бетIер – пикру. felmuya:ul beTer - faqlu, faqluya:ul beTer - Sabru, Sabruya:ul beTer - _ikru. Цо гIолилав ун вукIаравила рикIкIадаб улкаялде цIцIализе. ЦIцIалун вачIунаго, щваравила цо херав чияссда асскIове. cu folilaw un wujarawila riJadab ulkayalde ~ali#e. ~alun wazunago, &warawila co [eraw xiyaSda aSjowe. Гьикъарабила херав чиясс. hiqarabila [eraw xiyaS. - ГIелму щварабищ, гьудул? - felmu &warabi&, hudul? - Щвана, цIцIалун вахъана. - &wana, ~alun wa]ana. - ГIелмуялълъул бетIер щибхха? felmuya:ul beTer &ib{a? - Лъаларо. - ;alaro. - Лъалареб батани, – ян абун буго херасс, – мун дагьавги цIцIализе ккелахха. - ;alareb batabi, - yan abun bugo [eraS, - mun dahawgi ~ali#e Kela{a. Нахъвуссун вуго. Гьанжесса жиндирго устарассдассан гьассда лъан буго гIелмуялълъул бетIер щибали. na]wuSun wugo. han$eSa $indirgo ustaraSdaSan haSda ;an bugo felmuya:ul beTer &ibali. ГIолилав гьанжеги вачIун вуго кIудияв чияссухъе. folilaw han$egi wazun wugo judiyaw xiyaSu]e. - Щиб ккараб? Лъарабищ гIелмуялълъул бетIер щибали? – ян гьикъун буго кIудияв чиясс. - &ib Karab? ;alabi& felmuya:ul beTer &ibali? - yan hiqun bugo judiyaw xiyaS. - ГIелмуялълъул бетIер гIакълу буго, – ян жаваб кьун буго гIолиласс. - felmuya:ul beTer faqlu bugo, - yan $awab pun bugo folilaS. - БитIун буго. Элълъулги бетIер щибхха? – ян гьикъун буго херасс. - biTun bugo. e:ulgi beTer &ib{a? - yan hiqun bugo [eraS. Лъаларилан жаваб кьун буго гIолиласс. ;alarilan $awab pun bugo folilaS. КIудияв чиясс гIолохъанчи нахъвуссинавун вуго. «ГIелмуялълъул бетIер гIакълу, гIакълуялълъул бетIер ссабру, ссабруялълъул бетIер пикру буго», – ян жаваб кьезегIан. judiyaw xiyaS folo]anxi na]wuSinawun wugo. «felmuya:ul beTer faqlu, faqluya:ul beTer Sabru, Sabruya:ul beTer _ikru bugo», - yan $awab pe#efan. 440. ГIемер бихьани, гIемер лъалеб, гIемер цIцIалани, дагьабги цIцIикIкIун лъалеб. femer bi%ani, femer ;aleb, femer ~alani, dahabgi ~iJun ;aleb. 441. ГIемер бицани цого жо чIалгIунеб, гIемер чIамуни ссакъисс бутIунеб. femer bicani cogo $o zalfuneb, femer zamuni SaqiS buTuneb. 442. ГIемер букIине ккани, гIемер хIалтIизеги кколев. femer bujine Kani, femer \alTi#egi Kolew. 443. ГIемер вачIани, гьобол чIалгIуна, гIемер чIамуни, ссакъисс бутIуна. femer wazani hobol zalfuna, femer zamuni SaqiS buTuna. 444. ГIемер велъани, велъаравгIан гIодизеги ккола. femer we;ani, we;arawfan fodi#egi Kola. 445. ГIемер гаргади гIарац батани, гаргадичIого чIчIей месед буго. femer fargadi farac batani, gargadizogo Zey mesed bugo. 446. ГIемер гаргадулел Аллагьассеги рокьуларел. femer gargadulel allahaSegi ropularel. 447. ГIемер гьеданищ – гьеб буго гьересси. femer hedani& - heb bugo hereSi. 448. ГIемер гьедарулесс гIемер гьерссал рицунел. femer hedaruleS femer herSal ricunel. 449. ГIемер гIодой къуларай балъго хъахIба ятула, кIал чалуххай чидар яс черхх цIунарай ятула. femer fodoy qularay ba;go ]a\ba yatula, jal xalu{ay xidar yas xer{ `unaray yatula. 450. ГIемер гIорцIцIизабуни катицца гIункIкI кколареб, цIакъго гогьдаризаруни лъималаз дунял гьабулареб. femer for~i#abuni katiCa funJ Kolareb, `aqgo gohdari#aruni ;imala# dunyal habulareb. 451. ГIемер жо лъанилан гIакъил вахъунарев. femer $o ;anilan faqil wa]unarew. 452. ГIемер кванани, гьоцIцIоги кьогIлъулеб. femer kwanani, ho~ogi pof;uleb. 453. ГIемер кванани кванил тIагIам хола, гIемер бицани рагIул магIна хола. femer kwanani kwanil Tafam [ola, femer bicani raful mafna [ola. 454. ГIемер кванани чехь унтулеб, гIемер гаргадани бетIер унтулеб. femer kwanani xe% untuleb, femer gargadani beTer untuleb. 455. ГIемер кванарассул квандасса хьул буссуна, гIемер гаргадулессдасса гIадамазул ракI буссуна. femer kwanaraSul kwandaSa %ul buSuna, femer gargaduleSdaSa fadama#ul raj buSuna. 456. ГIемер кванаялълъ кечI ахIиларо. femer kwanaya: kez a\ilaro. 457. ГIемер квер – кьарияб, цо квер – хIалакъаб. femer kwer - pariyab, co kwer - \alaqab. 458. ГIемер къвакъвадулеб къурщицца хоно гьабуларебила. femer qwaqwaduleb qur&iCa [ono habularebila. 459. ГIемер къвакъвадулелълъул ханал дагьал рукIуна. femer qwaqwadule:ul [anal dahal rujuna. 460. ГIемер кьвагьуге, ишан ккун кьвагье. femer pwahuge, i^an Kun pwahe. 461. ГIемер кIалъай гIарац батани, кIалъачIого чIчIей меседила. femer ja;ay farac batani, ja;azogo Zey mesedila. 462. ГIемер кIалъалессул хIалтIи дагьаб. femer ja;aleSul \alTi dahab. 463. ГIемер лълъадахъани, гIеретI бекула. femer :ada]ani, fereT bekula. 464. ГIемер лъай, дагь кIалъай. femer ;ay, dah ja;ay. 465. ГIемер лIухьун рукъ бацIцIалъулареб, рацIцIалъи цIунулеб гьечIони, гIемер чурун ретIел бацIцIалъулареб, бацIцIад цIунизе лъачIони. femer /u%un ruq ba~a;ulareb, ra~a;i `unuleb hezoni, femer xurun reTel ba~a;ulareb, ba~ad `uni#e ;azoni. 466. ГIемер мехх барассда гуребила лъалеб, гIемер бихьарассдайила. femer me{ baraSda gurebila ;aleb, femer bi%araSdayila. 467. ГIемер мехх барассда гIемераб лъалеб (дудасса цо къоялълъ кIудияссул цо къоялълъул гIакълу цIцIикIкIун букIунеб). femer me{ baraSda femerab ;aleb (dudaSa co qoya: judiyaSul co qoya:ul faqlu ~iJun bujuneb). 468. ГIемер мехх барассда гIемер лъала, дуниял бихьарассда дагьабги цIцIикIкIун лъала. femer me{ baraSda femer ;ala, duniyal bi%araSda dahabgi ~iJun ;ala. 469. ГIемер меххалълъ чIчIараб жоги – хIама, чIчIечIого вилълъаравги – гIабдал. femer me{a: Zarab $ogi - \ama, Zezogo wi:arawgi - fabdal. 470. ГIемер тIад тенкани, ганчIидаги гвенд лIугьуна. femer Tad tenkani, ganzidagi gwend /uhuna. 471. ГIемер чIчIейги цIцIар гуро, чIчIечIого вилълъинги рецц гуро. femer Zeygi ~ar guro, Zezogo wi:ingi reC guro. 472. ГIемераб беццараб роццаххун уна. femerab beCarab roCa{un una. 473. ГIемераб бокьарассе дагьабгицин щоларо. femerab boparaSe dahabgicin &olaro. 474. ГIемераб гIазу – гIемераб тIорщел. femerab fa#u - femerab Tor&el. 475. ГIемераб – гIорцIцIизегIан, дагьаб – тIагIинегIан. femerab - for~i#efan, dahab - Tafinefan. 476. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикIго лъай лълъикIабила. femerab $o kwe^go ;ayaldaSa conigi $o :ijgo ;ay :ijila. Цо къоялълъ хъаз къуркъбузул хIорихъе бачIун буго. Жидерго хIорде хъаз бачIин къуркъбузе рекIее гIун гьечIо. КIиялго къаццандизе, цоцазде рогьрал разе лIугьун руго. Хъаз чIухIун кIалъан буго - «Дида лълъедезеги лъала, ракъдассан билълъинеги лъала, гьаваялдассан боржинеги кIола…» co qoya: ]a# qurqbu#ul \ori]e bazun bugo. $idergo \orde ]a# bazin qurqbu#e rejeye fun hezo. jiyalgo qaCandi#e, coca#de rohral ra#e /uhun rugo. ]a# zu\un ja;an bugo - «dida :ede#egi ;ala, raqdaSan bi:inegi ;ala, hawayaldaSan bor$inegi jola...» Гьелълъ бицунебги гьоркьоб къотIизабун, цо къверкъалълъ гьелълъие жаваб кьун буго - «Дуда чан жо лъалеб батаниги, цонигияб рагIа-ракьанде щун лъаларо. ГIемераб жо квешго лъаялдасса цониги жо лълъикI лъай лълъикIаб буго» he: bicunebgi horpob qoTi#abun, co qwerqa: he:iye $awab pun bugo - «duda xan $o ;aleb batanigi, conigiyab rafa-rapande &un ;alaro. femerab $o kwe^ ;ayaldaSa conigi $o :ij ;ay :ijab bugo» 477. ГIемераб зигардиялдасса дагьаб жигар лълъикIаб. femerab #igardiyaldaSa dahab $igar :ijab. 478. ГIемераб кванани, гьоцIцIоги загьрулъулебила. femerab kwanani, ho~ogi #ahru;ulebila. 479. ГIемераб рахIаталдасса рагIулареб хIалтIи лълъикIаб. femerab ra\ataldaSa rafulareb \alTu :ijab. 480. ГIемераб рокъоб лълъикIаб, рекъараб ургьиб лълъикIаб. femerab roqob :ijab, reqarab urhib :ijab. 481. ГIемераб цIцIад бани ххер лълъикI бижула, гIемер кIалъанани калам хола. femerab ~ad bani {er :ij bi$ula, femer ja;anani kalam [ola. 482. ГIемер бицардана – дагьаб бичIчIана. femer bicardana - dahab biZana. 483. ГIемерав бицардани, гIемерав мекъи ккола. femeraw bicardani, femeraw meqi Kola. 486. ГIемерав вегиялълъ габур гьетIарав, гIемерав кьижиялълъ рукьби унтарав. femeraw wegiya: gabur heTaraw, femeraw pi$iya: rupbi untaraw. 487. ГIемерал санал рарассда гуребила лъалеб, гIемераб бихьарассдайила. femeral sanal raraSda gurebila ;aleb, femerab bi%araSdayila. 488. ГIемерги гаргадуге, мунго гIантав гьечIолъиги лъазабичIогоги тоге. femergi gargaduge, mungo fantaw hezo;igi ;a#abizogogi toge. 489. ГIемерго бакъваги гьабуге, бакъалда балеб хIалалълъ лълъамаги гьабуге. femergo baqwagi habuge, baqalda baleb \ala: :amagi habuge. 490. ГIемерго веццулев вугони, гьелда нахъа бугеб гъвацилги хIисаб гьабейила. femergo weCulew wugoni, helda na]a bugeb vwacilgi \isab habeyila. 491. ГIемерго къвакъвадани, цо балагьалде ккола. femergo qwaqwadani, co balahalde Kola. 492. ГIемерго къвакIани, къвакIан бекула. femergo qwajani, qwajan bekula. 493. ГIемерго къваригIани, къатIраги щолареб. femergo qwarifani, qaTragi &olareb. 494. ГIемерго нечарав бихьинчиги лълъикIав вукIунарев, нич бахъарай чIчIужугIаданги лълъикIай йикIунарей. femergo nexaraw bi%inxigi :ijaw wujunarew, nix ba]aray Zu$ufadangi :ijay yijunarey. 495. ГIемерго пударун, бакъул ххинлъи хвезабуге. femergo _udari, baqul {in;i [we#abuge. 496. ГIемерго сихIирлъиги хIалихьалъийила. femergo si\ir;igi \ali%a;iyila. 497. ГIемерго ххиралъиялълъ катицца тIинчI кванарабила. femergo {ira;iya: katiCa Tinz kwanarabila. 498. ГIемерго хIалимлъиги хIалихьалъийила. femergo \alim;igi \ali%a;iyila. 499. ГIемериссеб балагь – мацIцIалълъул балагь. femeriSeb balah - ma~a:ul balah. 500. ГIемериссел мунагьал мацIцIалдалъун рукIунел. femeriSel munahal ma~alda;un rujunel. 501. ГIемерлъани меседилги къимат холебила. femer;ani mesedilgi qimat [olebila. 502. ГIенеккулезухъ балагьун бице, бицаралълъухъ балагьун борце. feneKule#u] balahun bice, bicara:u] balahun borce. 503. ГIенеккун чIчIейги жавабила. feneKun Zeygi $awabila. 504. ГIергIедулеб басиялълъ рохьдой хIалхьи толаро, кIалдисса хъачIав чиясс жамагIатги квегъула. ferfeduleb basiya: ro%doy \al%i tolaro, jaldiSa ]azaw xiyaS $amafatgi kwevula. 505. ГIерещмухIумил гьобо гIадин ссвакан бугила. fere&mu\umil hobo fadin Swakan bugila. 506. ГIетI баккичIеб бетIер батIаргьиналълъ къазе кколеб. feT baKizeb beTer baTarhina: qa#e Koleb. 507. ГIетI баккулел кверазда нах бахинчIого ххутIулареб. feT baKulel kwera#da na[ ba[inzogo {uTuleb. 508. ГIетIуцца ссвак бахъулеб, ссапнацца гъиз бахъулеб. feTuCa Swak ba]uleb, Sa_naCa vi# ba]uleb. 509. ГIечугъотIодасса цIулакьо чIвалареб. fexuvoTodaSa `ulapo zwalareb. 510. ГIеч квани – гага, гени квани – гIоркь. fex kwani - gaga, geni kwani - forp. 511. ГIечудасса Хважа гIадин вуссанила. fexudaSa [wa$a fadin wuSanila. 512. ГIи бугев чийилан, чияссе ратIа кьечIев, чанаве ун, чияда маза гьанал бихьичIев. fi bugew xiyilan, xiyaSe raTa pezew, xanawe un, xiyada ma#a hanal bi%izew. 513. ГIи бугони – чаландар, чу бугони – багьадур. fi bugoni - xalandar, xu bugoni - bahadur. 514. ГIи гьабилалде гIиял хьон гьабе (ГIиял хьон – ххер, ххарил хьон – беэнлъи). fi habilalde fiyal %on (fiyal %on - {er, {aril %on - been;i). 515. ГIи гьечIеб бечелъиги бечелъи гуро, тIеренаб хьвацIцIил чаранлъиги чаранлъи гуро. fi hezeb bexe;igi bexe;i guro, Terenab %wa~il xaran;igi xaran;i guro. 516. ГIи гьечIессул гьан дагьаб, хIама гьечIессул цIул дагьаб. fi hezeSul han dahab, \ama hezeSul `ul dahab. 517. ГIи кьаралъи – вехьассул гьунар, гIака кьаралъи – чIчIужуялълъул гьунар. fi para;i - we%aSul hunar, faka para;i - Zu$uya:ul hunar. 518. ГIи мискинасс хьихьулеб, гьан бечедасс кваналеб. fi miskinaS %i%uleb, han bexedaS kwanaleb. 519. ГIи тIуридалила гIангис тIурулеб (Радал гIи тIурулеб, гIангис къаденахъе тIурулеб). fi Turidalila fangis Turuleb (radal fi Turuleb, fangis qadena]e Turuleb). 520. ГIи хьихьичIесс хьолбол гьан кунареб. fi %i%izeS %olbol han kunareb. 521. ГIи цIунизе бацI тоге, яс цIунизе вас тоге. fi `uni#e ba` toge, yas `uni#e was toge. 522. ГIи цIунизе бацI тарав. fi `uni#e ba` taraw. 523. ГIи чохьоцца гъурула, базар гъараялълъ уна, на гьороцца босула, гьабал ихицца уна. Хур босе! Хур босе! (Гьидерил кици). fi xo%oCa vurula, ba#ar varaya: una, na horoCa bosula, habal i[iCa una. [ur bose! [ur bose! (hideril kici). 524. ГIибрат босун хIалтIарав хIалтIулI нахъа кколаро, гIумруялълъул нух лъарав нахъа пашманлъуларо. fibrat bosun \alTaraw \alTu/ na]a Kolaro, fumruya:ul nu[ ;araw na]a _a^man;ularo. 525. ГIигIлу – гIадамассул, къадар – Аллагьассул. fiflu - fadamaSul, qadar - allahaSul. 526. ГIила гьечIеб жо гьечIеб, гIайиб гьечIев чи гьечIев. fila hezeb $o hezeb, fayib hezew xi hezew. 527. ГIила гьечIого барщарав, мухь кьечIого рекъолевила. fila hezogo bar&araw, mu% pezogo reqolewila. 528. ГIила гьечIого гIемер велъулев чи – черххалълъул цо чIил камурав чи. fila hezogo femer we;ulew xi - xer{a:ul co zil kamuraw xi. 529. ГIин тIаме, битIаралда гурони божуге. fin Tame, biTaralda guroni bo$uge. 530. ГIин цIуне къваригIел гьечIеб рагIиялдасса, бер цIуне къваригIел гьечIеб жоялдасса (къваригIел гьечIеб рагIугеги, ссурукъаб бихьугеги). fin `une qwarifel hezeb rafiyaldaSa, ber `une qwarifel hezeb $oyaldaSa (qwarifel hezeb rafugegi, Suruqab bi%ugegi). 531. ГIиналдасса бер ццебессеб. finaldaSa ber CebeSeb. 532. ГIинкъав беццассда баххиллъулевила, беццав гIинкъассда баххиллъулевила. finqaw beCaSda ba{il;ulewila, beCaw finqaSda ba{il;ulewila. 533. ГIинкъав нечоларев, беццав хIинкъуларев. finqaw nexolarew, beCaw \inqularew. 534. ГIинкъав чияссе кIицIцIул как ахIулареб. finqaw xiyaSe ji~ul kak a\ulareb. 535. ГIинкъай бахIарай гIадин. finqay ba\aray fadin. БахIаралда рагIулеб букIун гьечIо асскIор ругез бицунеб жо. Гьелълъ асскIой йигей гьудулалада гьарун буго, цогидал релъулеб меххалълъ, жиндаги тункейилан. Гьудул, цо рахъалде юссунаго, бахIаралда дагьайго хъван йиго, бахIаралълъги гьабун буго цо кIудияб релъи. ba\aralda rafulareb bujun hezo aSjor ruge# bicuneb $o. he: aSjoy yigey hudulalda harun bugo, cogidal re;uleb me{a:, $indagi tunkeyila. hudul, co ra]alde yuSunago, ba\aralda dahaygo ]wan yigo, ba\ara:gi habun bugo co judiyab re;i. 536. ГIинкъаллъун жанире айила, беццаллъун къватIире лIугьайила. finqal;un $anire ayila, beCal;un qwaTire /uhayila. 537. ГIинкъассда вихьизе чIчIоге, беццассухъе кквезе чIчIоге. finqaSda wi%i#e Zoge, beCaSu]e Kwe#e Zoge. 538. ГIинкъассда щуруге, беццассде къинкIуге. finqaSda &uruge, beCaSde qinjuge. 539. ГIинтIи квараб меххалълъ буртIал гIадин. finTi kwarab me{a: burTal fadin. 540. ГIинтIи кварасс бакI-бакI хъассизе кколебила, ургъичIого кIалъарасс бакI-бакIги бетIерги хъассизе кколебила. finTi kwaraS baj-baj ]aSi#e Kolebila, urvizigo ja;araS baj-bajgi beTergi ]aSi#e Kolebila. 541. ГIинтIизе ццевеги кIанцIуге, речIчIизе нахъаги чIчIоге. finTi#e Cewegi jan`uge, reZi#e na]agi Zoge. 542. ГIисси-бикъинал накIкIал бакъуцца кунел, дагьа-макъаб унти кваницца унеб. fiSi-biqinal naJal baquCa kunel, daha-maqab unti kwaniCa uneb. 543. ГIиссинал чIинххазулги кIудияб гохI лIугьунеб. fiCinal zin{a#ulgi judiyab go\ /uhuneb. 544. ГIиссинккун тIинкIулебги лълъим лъарахъе щолебила. fiCinKun Tinjulebila :im ;ara]e &olebila. 545. ГIиссинлъималазул лъелав ццевехъан. fiCin;imala#ul ;elaw Cewe]an. 546. ГIишкъуе чIалгIен гьечIеб, балаялълъе ссвак гьечIеб. fi^quye zalfen hezeb, balaya:e Swak hezeb. 547. ГIиядеги инаро, чуриги чIчIикIиларо. fiyadegi inaro, xurigi Zijilaro. 548. ГIияе бокьухъе бацI хвеларо. fiyaye bopu]e ba` [welaro. 549. ГIи къинлъиялдаги хурул хьоналдаги ххадув чи гъоларев. fi qin;iyaldagi [urul %onaldagi {aduw xi volarew. 550. ГIиял рехъеналълъе цо бацIги гIемераб. fiyal re]ena:e co ba`gi femerab. 551. ГIиялI цIцIелъуналдасса цIцIаналI дегIенлъунго лълъикI. fiya/ ~e;unaldaSa ~ana/ defen;ungo :ij. 552. ГIодизе ккедал – йоххарай, йоххизе ккедал – гIодарай. fodi#e Kedal - yo{aray, yo{i#e Kedal - fodaray. 553. ГIодичIони лъимадуе керен кьолареб. fodizoni ;imaduye keren polareb. 554. ГIодоб батани катан кьолев, куй къинлъани кьегIер кьолев. fodob batani katan polew, kuy qin;ani pefer polew. 555. ГIодоб лъезе тIину гуреб, кодобе босизе гIоркь гуреб. fodob ;e#e Tinu gureb, kodobe bosi#e forp gureb. 556. ГIодоб ракь босарасс тIад битIун зобги босулеб. fodob rap bosaraS Tad biTun #obgi bosuleb. 557. ГIодоб – турут, таххида – маххмар. fodob - turut, ta{ida - ma{mar. 558. ГIодобакI – бечедаб жо. fodobaj - bexedab $o. 559. ГIодобе биччараб накIкIил кьерхен ххалатаб. fodobe biXarab naJil per[en {alatab. 560. ГIодобе реххараб жоялълъе кодобе босулев чи камуларевила. fodobe re{arab $oya:e kodobe bosulew xi kamularewila. 561. ГIодобе реххуге, гIодосса босе. fodobe re{uge, fodoSa bose. 562. ГIодобе туни – мегеж, эххеде туни – михъал. fodobe tuni - mege$, e{ede tuni - mi]al. 563. ГIодобе тIураб лълъим тIад буссунареб. fodobe Turab :im Tad buSunareb. 564. ГIодов – гIадатав, чотIа – аздагьо (ХIажимурадил хIакъалълъулI). fodow - fadataw, xoTa - a#daho (\a$imuradil \aqa:u/). 565. ГIодов чIчIолелълъул къулиялълъухъ ралагье, тIаде вахъунелълъул ворххиялълъухъ ралагье. fodow Zole:ul quliya:u] ralahe, Tade wa]une:ul wor{iya:u] ralahe. 566. ГIодов чIчIун вукIинегIан чIобого хIалтIулев вукIинги лълъикIаб. fodow Zun wujinefan zobogo \alTulew wujingi :ijab. 567. ГIодове валагьичIого векерарассул квергIаги гIодоб чIвала. fodowe walahizogo wekeraraSul kwerfagi fodob zwala. 568. ГIодове виччан вилълъа, унелълъуве щвезе, ххеххлъичIого кIалъай, мекъсса ккунгутIизе. fodowe wiXan wi:a, une:uwe &we#e, {e{;izogo ja;ay, meqSa KunguTi#e. 569. ГIодове виччан вилълъарасс нух гIемер толеб. fodowe wiXan wi:araS nu[ femer toleb. 570. ГIодой йикIун тIала гурей, тIаде яхъун мерго гурей. fodoy yijun Tala gurey, Tade ya]un mergo gurey. 571. ГIодой чIчIани квенчIчIел цIурай, тIаде яхъани бащдаб щущарай. fodoy Zani kwenZel `uray, Tade ya]ani ba&dab &u&aray. 572. ГIодор ккун, тIаде рахъунила кIудиял гIолел, гъалатIал гьарулагойила гIакълуялде щолел. fodor Kun Tade ra]unila judiyal folel, valaTal harulagoyila faqluyalde &olel. 573. ГIодорчIчIей хIалхьияб жо бугоанила, гIодор чIчIарабгIан меххалълъ рахъун чIчIезе кколарелани. fodorZey \al%iyab $o bugoanila, fodor Zarabfan me{a: ra]un Ze#e Kolarelani. 574. ГIодоре риччан гьабураб хIалтIи лIугIулеб, цо хIохьолI, цо каралълъ чIван гьабураб ххутIулеб. fodore riXan haburab \alTi /ufuleb, co \o%o/, co kara: zwan haburab {uTuleb. 574. ГIодосса кибего унарин, цин туртидасса кванаян абулебила бакъалда бараб ролI кваназе рачIарал тIанчIазда къадкицца. fodoSa kibego unarin, cin turtidaSa kwanayan abulebila baqalda barab ro/ kwana#e razaral Tanza#da qadkiCa. 576. ГIодоссан зваргъи рагIарав, зодоссан дваргъи рагIарав. fodoSan #warvi rafaraw, #odoSan dwarvi rafaraw. 577. ГIодоссан регьел кьун тIегь баккуларо, тIассан бакъуццаги ххинлъи кьечIони. fodoSan rehel pun Teh baKularo, TaSan baquCagi {in;i pezoni. 578. ГIодулаго аниги ине ккола Гула гвандинибе, квен босун гIагIадулаго аниги ине ккола. fodulago anigi ine Kola gula gwandinibe, kwen bosun fafadulago anigi ine Kola. ХIажимурад гIурусазул рахъалде араб меххалълъ Шамилицца гьессул хъизан тусснахъалда жаний тIамун йиго. КIодоэбелалълъ ХIажимурадил гьитIинав вас Гула гвандинир тIамуразе квен босун витIулев вукIун вуго. Гула гьениве унаго цин гIодулев вукIун вуго, нахъеги жинццаго жиндиего гьадаб кицилъун ккараб гIакълуги кьун вуцIцIунев вукIун вуго. Жакъа гьаб кици хIалтIизабула, бокьаниги бокьичIониги, тIадаб иш тIубазабизе кколилан абураб магIнаялда. \a$imurad furusa#ul ra]alde arab me{a: ^amiliCa heSul ]i#an tuSna]alda $aniy Tamun yigo. jodoebela: \a$imuradil hiTinaw wac gula gwandinir Tamura#e kwen bosun wiTulew wujun wugo. gula heniwe unago cin fodulew wujun wugo, na]egi $inCago $indiyego hadab kici;un Karab faqlugi pun wu~unew wujun wugo. $aqa hab kici \alTi#abula, bopanigi bopizonigi, Tadab i^ Tuba#abi#e Kolilan aburab mafnayalda. 579. ГIодулареб бералдассаги цIунаги, гIорцIцIулареб чехьалдассаги цIунаги. fodulareb beraldaSagi `unagi, for~ulareb xe%aldaSagi `unagi. 580. ГIодун бахъараб хъала бихьичIо, гьардон щвараб гьунар бихьичIо. fodun ba]arab ]ala bi%izo, hardon &warab hunar bi%izo. 581. ГIодун - руцIцIунила лъимал гIолел. fodun - ru~unila ;imal folel. 582. ГIолохъанаб меххалълъ хIамаги берцинаб. folo]anab me{a: \amagi bercinab. 583. ГIолохъанго бахъинчIони чодул нухда хIур херлъараб меххалълъ бахъунаребила. folo]ango ba]inzoni xodul nu[da \ur [er;arab me{a: ba]unarebila. 584. ГIолохъанлъи мудалълъ кьолеб букIараб батани, херлъи ссахIицца кьолеб буго. folo]an;i muda: poleb bujarab batani, [er;i Sa\iCa poleb bugo. 585. ГIолохъанлъиялълъул рахIат босарав херлъидал зигардулев. folo]an;iya:ul ra\at bosaraw [er;idal #igardulew. 586. ГIолохъанлъуда лъачIеб рокьи щай, вакъидал щвечIеб квен щай? folo]an;uda ;azeb ropi &ay, waqidal &wezeb kwen &ay? 587. ГIолохъанчи диццаги рехханин, херав чиясс дунги рехханилан абурабила нухалълъ. folo]an;i diCagi re{anin, [eraw xiyaS dungi re{anilan aburabila nu[a:. 588. ГIолохъанчи нухалълъ чIвалевила, херав чиясс нух чIвалебила. folo]anxi nu[a: zwalewila, [eraw xiyaS nu[ zwalebila. 589. ГIолохъанчияссул кутак бергьараб, херав чияссул маххщел бергьараб. folo]anxiyaSul kutak berharab, [eraw xiyaSul ma{&el berharab. 590. ГIолохъанчияссул ракI – заз гIадаб жо. folo]anxiyaSul raj - #a# fadab $o. 591. ГIондокь кьиндал хисулеб, кьерагъо къойил хисулеб. fondop pindal [isuleb, peravo qoyil [isuleb. 592. ГIонкIкIода данде кетолъун вукIа, бацIида данде гъалбацIлъун вукIа. fonJoda dande keto;un wuja, ba`ida dande valba`;un wuja. 593. ГIонкIкIодассан ккараб тIинчIалълъ къвачIа букъичIого толареб. fonJodaSan Karab Tinza: qwaza buqizogo tolareb. 594. ГIонкIкIое кетоги гъалбацIила. fonJoye ketogi valba`ila. 595. ГIонкIкIол кето гьабуге, катил гъалбацI гьабуге. fonJol keto habuge, katil valba` habuge. 596. ГIонкIкIотIинчIалълъ къвачIа букъула, хъурмил тIинчIалълъ кьегIер чIвала. fonJoTinza: qwaza buqula, ]urmil Tinza: pefer zwala. 597. ГIонкIкIолаб гьабурассе катилаб гьабе. fonJolab haburaSe katilab habe. 598. ГIонкIкIолги букIунеб жиндаго рекъараб цIуна-къай, гIанххрилги букIунеб жиндаго рекъараб рукъалълъул низам. fonJolgi bujuneb $indago reqarab `una-qay, fan{rilgi bujuneb $indago reqarab ruqa:ul ni#am. 599. ГIонкIкIоцца букъун къвачIа тIагIинаро. fonJoCa buqun qwaza Tafinaro. 600. ГIонкIкIоцца инкар ккун кето чIчIоларо, квегIенлъи ккарабго тIад речIчIичIого. fonJoCa inkar Kun keto Zolaro, kwefen;i Karabgo Tad reZizogo. 601. ГIор бахун ххадуб кьо щай? for ba[un {adub po &ay? 602. ГIор бахунеб меххалълъ гурони, чIчIегIерабги хъахIабги нахъияб рахъ лъалареб. for ba[uneb me{a: guroni, Zeferabgi ]a\abgi na]iyab ra] ;alareb. 603. ГIор кьодухъе буссуна, чу кьолокье буссуна. for podu]e buSuna, xu polope buSuna. 604. ГIор кIодолъизейилан кIващ биччалареб. for jodo;i#eyilan jwa& biXalareb. 605. ГIор ххалалъухъе кьо балареб. for {ala;u]e po balareb. 606. ГIор щун букIаго, цIул бахъе. for &un bujago, `ul ba]e. 607. ГIорал ралъдахъе уна, гьерссал гьороцца уна. foral ra;da]e una, herSal horoCa una. 608. ГIоралдасса хоно тIокIлъаниги, гIемерал ругилан эбел-инссуе лъимал тIокIлъуларел. foraldaSa [ono Toj;anigi, femeral rugilan ebel-inSuye ;imal Toj;ularel. 609. ГIоралълъ восун унесс хIотол нихьваялдеги квер ххапулеб. fora: wosun uneS \otol ni%wayaldegi kwer {a_uleb. 610. ГIорго бихьилалде хьитал рахъуге (гIорго бихьилалде хьитал рахъарай). forgo bi%ilalde %ital ra]uge (forgo bi%ilalde %ital ra]aray). 611. ГIоркь-рачIчI гьечIеб рагIи бицун, мунго учуз гьавуге, дурго гIайибалги раххчун, чиядеги бугъуге. forp-raZ hezeb rafi bicun, mungo uxu# hawuge, durgo fayibalgi ra{xun, xiyadegi buvuge. 612. ГIоркь-рачIчI гьечIел рагIаби гIадамалълъе росуге. forp-raZ hezel rafabi fadama:e rosuge. 613. ГIоркьилав рокъов цIакъав, бахIарчи кьалда цIакъав. forpilaw roqow `aqaw, ba\arxi palda `aqaw. 614. ГIорхъолIа борчIараб бечелъи – баччизе захIматаб гьир. for]o/a borzarab bexe;i - baXi#e #a\matab hir. 615. ГIорцIцIараб къоялълъ михъал кIичIун, нахъиссеб къоялълъ михъал далун, нахърател букIунареб. for~arab qoya: mi]al jizun, na]iSeb qoya: mi]al dalun, na]ratel bujunareb. 616. ГIорцIцIараб рокъоб бакъараб кето. for~arab roqob baqarab keto. 617. ГIорцIцIарав гIеркъолевила, вакъарав семулевила. for~araw ferqolewila, waqaraw semulewila. 618. ГIорцIцIаразул ракI гъезе годекIанире унге. for~ara#ul raj ve#e godejanire unge. 619. ГIорцIцIарал бубудула, ракъарал мимидула. for~aral bubudula, raqaral mimidula. 620. ГIорцIцIарассда вакъарав лъаларев, ххинлъарассда вугьарав лъаларев. for~araSda waqaraw ;alarew, {in;araSda wuharaw ;alarew. 621. ГIорцIцIарассеялдасса вакъарассе кумек гьабизе бигьаябила. for~araSeyaldaSa waqaraSe kumek habi#e bihabila. 622. ГIорцIцIиялълъул макруялдассаги цIунаги, ракъиялълъул балагьалдассаги цIунаги. for~iya:ul makruyaldaSagi `unagi, raqiya:ul balahaldaSagi `unagi. 623. ГIорцIмада эмен цIеххедал, эбел гIала кколилан абурабила. for`mada emen `e{edal, ebel fala Kolilan aburabila. 624. ГIорцIцIул балагь ракъул балагьалдасса кIудияб. for~ul balah raqul balahaldaSa judiyab. 625. ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан бакъун эркенлъиялдаго лълъикIила. for~un lav;iyalda bujinefan baqun erken;iyalda :ijila. Кваназе жо балагьизе бачIунеб бацIида гьой данделъанила. - Дур кьаралъиго щиб? ЛълъиццагIаги мун гьеб хIалалълъ хьихьулеб? – ан гьикъанила бацIицца. - Рукъ-бакI цIунаралълъухъ бетIергьанасс хьихьула, – ян абунила гьойцца. Жинццаги цIунилаанин рукъ-бакI, кваназе жо кьолеб батаниян абунила бацIицца. Разилъанила гьой бацI росулIе бачине. Гьой ццебе-ццебе букIанила, бацI ххадуб букIанила. БацIицца гьойда гьикъанила гьеб дур габуралълъе лIугьараб жо щибилан. Раххссицца хIулизабун бугилан абунила гьойцца. - Гьедин батани, билълъинаро дун дуда цадахъ! ГIорцIцIун лагълъиялда букIинегIан, бакъун эркенлъиялдаго бокьила! Гьединги абун, бацI рохьобеххун балагьун анила. kwana#e $o balahi#e bazuneb ba`ida hoy dande;anila. - dur para;igo &ib? :iCafagi mun heb \ala: %i%uleb? - an hiqanila ba`iCa. - ruq-baj `unara:u] beTerhanaS %i%ula, - yan abunila hoyCa. $inCagi `unilaanin ruq-baj, kwana#e $o poleb bataniyan abunila ba`iCa. ra#i;anila hoy ba` rosu/e baxine. hoy Cebe-Cebe bujanila, ba` {adub bujanila. ba`iCa hoyda hiqanila heb dur gabura:e /uharab $o &ibilan. ra{SiCa \uli#abun bugilan abunila hoyCa. - hedin batani, bi:inaro dun duda cada]! for~un lav;iyalda bujinefan, baqun erken;iyalda bopila. hedingi abun, ba` ro%obe{un balahun anila. 626. ГIорцIцIун ххадуб квараб – шайтIаналълъейила. for~un {adub kwarab - ^ayTana:eyila. 627. ГIочIотIа чIван, чIалитIа ххун. fozoTa zwan, zaliTa {un. 628. ГIощтIода рекъарабила гIоркьги букIунеб. fo&Toda reqarabila forpgi bujuneb. 629. ГIощтIода ххадуб гIоркь реххуге. fo&Toda {adub forp re{uge. 630. ГIощтIое рохь гурев, рохьдое мегIер гурев. fo&Toye ro% gurew, ro%doye mefer gurew. 631. ГIощтIолгун кьал ахIун, гIоркьгун рекъоге. fo&Tolgun pal a\un, forpgun reqoge. 632. ГIужда квегъичIеб барти квегъуд буссунаро, гIужда хIалтIичIел кверал нахъа ругьунлъуларо. fu$da kwevizeb barti kwevud buSunaro, fu$da \alTizel kweral na]a ruhun;alaro. 633. ГIужда чIор гIабдалассухъаги щвезе бегьулеб. fu$da zor fabdalaSu]agi &we#e behuleb. 634. ГIужилав чанахъанассул гула алххунаро, гIакъилав чияссул рагIи гIодоб ххутIуларо. fu$ilaw xana]anaSul gula alqunaro, xiyaSul xiyaSul rafi fodob {uTularo. 635. ГIужрукъалълъ тIанчIазда абулебила, нуж бищунго хIеренал, хIули гIадал тамахал. fu$ruqa: Tanza#da abulebila, nu$ bi&ungo \erenal, \uli fadal tama[al. 636. ГIужрукъалълъул багьа цIакихъ кьоге, гIадамассе къимат ратIлихъ кьоге. fu$ruqa:ul baha `aki] poge, fadamaSe qimat raTli] poge. 637. ГIумру бугила гIурччинаб ххер гIадаб жо, балагьалдасса ххвассарлъаниги, ххарицелалдасса борчIулареб. fumru bugila furXinab {er fadab $o, balahaldaSa {waSar;anigi, {aricelaldaSa borzulareb. 638. ГIумру кьурасс хвелги кьолебила. fumru puraS [welgi polebila. 639. ГIумруги бихьарав, бихьанщинабги хIехьарассул гурони, чIара-хьараб гIамал-ххассият букIунареб. fumrugi bi%araw, bi%an&inabgi \e%araSul guroni, zara-%arab famal-{aSiyat bujunareb. 640. ГIумруги талихIила, хвелги талихIила. fumrugi tali\ila, [welgi tali\ila. 641. ГIумруялда рекъарабила хвел букIунеб. fumruyalda reqarabila [wel bujuneb. 642. ГIумруялълъул аххир къанда хIарщ речIчIидал лъала. fumruya:ul a{ir qanda \ar& reZidal ;ala. 643. ГIун бачIунеб гIелалълъ тараб цIцIали – гIун бачIунеб гъотIода бараб хIапаро. fun bazuneb fela: tarab ~ali - fun bazuneb voToda barab \a_aro. 644. ГIунараб катицца гIорчо кIудияб хъамулеб (ГIунараб катицца гьорчо кIудияб биччалеб). funarab katiCa forxo judiyab ]amuleb (funarab katiCa horxo judiyab biXaleb). 645. ГIунарассул лъорове вугьарав лIугьаравила. funaraSul ;orowe wuharaw /uharawila. 646. ГIундул рихьун – хIама, рачIчI бихьун – дегIен. fundul ri%un - \ama, raZ bi%un - defen. 647. ГIункIкI бечIчIулев, кIкIара чIунтIулев (ГIункIкIбечIчI, кIкIарачIунтI). funJ beZulew, Jara zunTulew (funJbeZ, JarazunT). 648. ГIункIкI кIурщунилан лъар хъублъулареб. funJ jur&unilan ;ar ]ub;ulareb. 649. ГIункIкIаз гIащтIи букъи – багьана. funJa# fa&Ti buqi - bahana. 650. ГIункIкI кквезегIан, кетоги беццуге, цер кквезегIан, бахIриги беццуге. funJ Kwe#efan, ketogi beCuge, cer Kwe#efan, ba\rigi beCuge. 651. ГIункIкI – цагъринибе, цер – авлахъалде. funJ - cavrinibe, cer - awla]alde. 652. ГIункIкIги кетоги рекъани, бакъал тукен ххараблъула. funJgi ketogi reqani, baqal tuken {arab;ula. 653. ГIурав васасс корол хIамул рухъулел. furaw wasaS korol \amul ru]ulel. 654. ГIурай яс гIодизе бачIараб бацIие кье. furay yas fodi#e bazarab ba`iye pe. 655. ГIурай яс рокъой йигони, нусалълъе рахIат толареб. furay yas roqoy yigoni, nusa:e ra\at tolareb. 656. ГIурай яцц рокъой йигони, ваццассда вегун макьу щолареб. furay yaC roqoy yigoni, waCaSda wegun mapu &olareb. 657. ГIурассдасса воххуларев, хварассухъ гIодуларев. furaSdaSa wo{ularew, [waraSu] fodularew. 658. ГIурда хIал гьабуге, хурда дагь гьабуге (ГIуру гIемер суге, хур дагьаб бекьун тоге). furda \al habuge, [urda dah habuge (furu femer suge, [ur dahab bepun toge). 659. ГIурул ханазул гьабун къед чIчIолареб. furul [ana#ul habun qed Zolareb. 660. ГIурул хъуй тIагIаниги, гьекъолдухъанассул рокъоб питна тIагIунареб. furul ]uy Tafanigi, heqoldu]anaSul roqob _itna Tafunareb. 661. ГIурул хIари гIуруцца уна, лъарал хIари лъарацца уна. furul \ari furuCa una, ;aral \ari ;araCa una. 662. ГIурул чваххи хисаниги, чияссул гIамал хисуларебила. furul xwa{i [isanigi, xiyaSul famal [isularebila. 663. ГIурулI вукIун лълъим щоларев, лъаргIив вукIун ххер щоларев. furu/ wujun :im &olarew, ;arfiw wujun {er &olarew. 664. ГIуруцца лъарал гьаракь къотIизарурал къоял рачIунгеги, къоязул сардал гьарурал сонал рачIунгеги. furuCa ;aral harap qoTi#arural qoyal razungegi, qoya#ul sardal harural sonal razungegi. 665. ГIурхъиги аххирги ссундулго букIунебила. fur]igi a{irgi Sundulgo bujunebila. 666. ГIурччингобарщ. furXingobar&. 667. ГIурччинлъи савуялълъ бухIула, гIадан рекIел гьаваялълъ вухIула. furXin;i sawuya: bu\ula, fadan rejel hawaya: wu\ula. 668. ГIусазда хIал букIаго бекейила гьоло. fusa#da \al bujago bekeyila holo. 669. ГIусал рикIунилан чехь гIорцIцIулареб. fusal rijunilan xe% for~ulareb. 670. ГIухьби гIемераб гIи бацIицца гъурулеб. fu%bi femerab fi ba`iCa vuruleb. 671. ГIухьби гIемерлъанагIан гIи дагьлъулеб. fu%bi femer;anafan fi dah;uleb.

  • xh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Ц c 1. Ца таралълъ мегIер толеб. 2. Цаби гьечIеб кIал - гьобо гьечIеб гьабирукъ. 3. Цаби лълъикIал Аллагьассго рижарал, гьава лълъикIаб живго гIураб ракьалълъул. 4. Цабзакье гIолареб гIоссокье щвана. 5. Цагъур лълъикIай – чехь лълъикIай, росс лълъикIай – жийго лълъикIай. 6. Цадахъ кваналезда гьикъун, тIаме цIцIам. 7. Царада гьикъарабила дуе дур лълъади кинай йигейилан. Гьелълъ жаваб кьурабила - лълъадул эбел жиндирго россассе кинай йикIарай ятаниги, гьединай йигилан. 8. Царада макьилъги гIанкIуялила рихьулел. 9. Царада ракIалда - гIанкIуял, гIанкIуязда ракIалда - муч. 10. Царае балагьалълъе ккараб жо жиндирго цIцIокойила. 11. Царакьа хIинкъун, лIутиялдасса, цигун вагъун, хвей лълъикI. 12. Царал бикьи къваригIунеб бакIги букIунебила, бацIил бикьи къваригIунеб бакIги букIунебила. 13. Царал кIал гъунани, гъадиццаги букъулебила ракьа. 14. Царал – рукIун, гъадил – бусен. 15. Царахъе щварабги – бацIие, бацIихъе щварабги – бацIие. 16. Царацца бацIида гьикъарабила гьадигIан цIакъ дур габур щиб гьабун биццалъарабилан. БацIицца жаваб кьурабила, жиндирго къваригIелалълъ жибго ун, биццалъанилан. 17. Царацца веццарухъанассул гъвесс кваналаребила. 18. Царацца тIанчIазда гьикъулебила - жинцца нуж лъабго къоялълъищила хьихьилел, лъабго моцIцIалълъищилан. ТIанчIаз жаваб кьолебила - лъабго къоялълъ хьихьеян. 19. Царгъида нахъаги тушман ватулев, чолода нахъаги хъумур батулеб. 20. Цер кибе аниги – рачIчI ххадуб. 21. Цилгун гени кваналареб. 22. Цида релълъарав вукIаниги, гьудул гьудул вуго. 23. Цидул кутакалдасса царал хIила бергьараб. 24. Цин бихьараб – беццаб, кIиабизе бихьараб – рекъаб. 25. Цилгун гени кванаге, гIабдалассулгун маххссара гьабуге. 26. Цин бицани – берцинаб, кIицIцIул бицани – мухьучIаб. 27. Цин вихьарав – гьобол, кIиабизе вихьарав – гьудул. 28. Цин вихьун, чи лъаларев. 29. Цин гъол кьурдухъе кьурде, цинги дуего бокьухъе кьурде. 30. Цин гьабизе кIкIухIаллъани, кIицIцIул гьабизе кколеб. 31. Цин гьабун, лълъикIлъи гIолареб. 32. Цин гьабураб лълъикIлъи гIоларессе тIокIаб гьабуге. 33. Цин гьекъарав кIицIцIул меххтула. 34. Цин гIакъилассда гьикъе, цинги мунго ургъе. 35. Цин – каралълъ чIван, цин – хIохьолI чIван. 36. Цин кьалбал риччай, цинги эххедеги а. 37. Цин кIал бухIарассила карщиде ххеххго пулеб. 38. Цин кIанцIана, гарцIцI, мун – борчIана, кIиабизеги кIанцIана – борчIана, лъабабизеги кибе борчIулебан бихьила! 39. Цин кIодолъулел, кIицIцIул гьитIинлъулел. 40. Цин мекъсса кколел, цин ритIун кколел, битIун ккараб гьабе, мекъсса ккараб те. 41. Цин ургъейила, ххадуб кьвагьейила. 42. Цин хIама хIобода бухьейила, ххадуб Аллагьассул цIцIобалда тейила. 43. Цин цIцIердассан хъущтIараб хIамагицин кIиабизе цIцIерде бахунаребила. 44. Цин чияде ккун, чи ххутIуларев. 45. Циналълъул гъоркьагьабихъила, циналълъул тIассагьабихъила (чияссул гIумру цо ккураб хIалалда букIунаребила). 46. Циналълъул гIор кваналеб, циналълъул лъар кваналеб. 47. Цингиялдасса гьанже лълъикI, эбелалдасса яс лълъикI. 48. Цин-цин битIараб рагIиги гьерессилъулеб, цо-цо меххалълъ битIун гьабураб хIалтIиги мекъсса кколеб. 49. Цин-цин гьорчоги чи вихьунила гирулеб. 50. Цин-цин гьудулги тушманлъулев, цин-цин тушманги гьудуллъулев. 51. Цин-цин гIабдалассги бицунеб гIакъилаб рагIи, цин-цин гIакъилги мекъсса ккезе бегьулев. 52. Цин-цин гIакъилги къосунев, цо-цо гIайиб гIалимчияссдаги кколеб. 53. Цин-цин кьили чол мугъалда букIунебила, цин-цин бетIергьанчияссул мугъалда букIунебила. 54. Цицца гъалбацI чIваларо, гъадицца цIцIум чIваларо. 55. Цо багьана бугелда рекъечIесс кIиго багьана бугей хьихьизе кколей. 56. Цо бакIалда чIчIараб лълъим ххеххго махIцуна. 57. Цо бахIарчилъи лIугьунилан, реццги гьабуге, цо къадараб жо ккунилан, къадараб цIцIарги чIваге. 58. Цо бер кьижун бугони, цоялълъ хъаравуллъи ккве. 59. Цо берцинай ясалълъ тІад квер бахъидал, ТIасса унти унеб заман букІана. Ругелщинал ясал къочананиги, Къоял аралдасса сахлъулев гьечІо. 60. Цо бетIералда лълъикI лъала, кIиго бетIералда дагьабги лълъикI лъала. 61. Цо бихьараб хьодуе те. 62. Цо бице, кIиго бице – гъваридаб бице. 63. Цо босизе кIоларесс - “КIиго кье дихъе”, – ян абурабила. 64. Цо боххида чи вилълъунарев, цояб гьакибер чIчIун, цояб гирулареб. 65. Цо бугеб рукIкIенги – рорлъи тIекъаб, цо вугев васги – гIамал мекъав. 66. Цо бугессул къосараб, къого бугессул битIараб гIи. 67. Цо ганчIил къед лIугьунаро, цо гъотIол ах лIугьунаро. 68. Цо гулиццаги цер холеб, цо рагIуццаги кечI холеб. 69. Цо гурони гIумру гьечIеб, кIицIцIул дунялалде риччаларел. 70. Цо гъая гьечIеб берцинлъи букIунаребила. 71. Цо гъая гьечIого, гъветI бакъваларо, цо гIузру гьечIого, ракI бечIаларо. 72. Цо гъотIол ах лIугьунареб, цо хIамил гвай букIунареб, цо чияссул бо гIолареб. 73. Цо гьабе – царал гьабе, хъергъуян гъеду ккоге. 74. Цо гьабулев чиги вукIунев, цо тIад рекъолев чиги вукIунев. 75. Цо гьабураб бечеги тIасса цаби гьечIеб буго. 76. Цо гьекъарасс кIигоги гьекъолеб. 77. Цо гьересси бицарасс нусгоги бицунеб. 78. Цо гьересси бицарассда кIиабизе божуларел. РосулIе ахIи бан лълъикI, гIадамазул букIунеб кеп бихьизеян ракIалде ккун буго вехьассда. - БацI! БацI! ГIиялълъ бацI речIчIун буго! Ххеххго рачIа! – ян ахIдон вуго гьев. ХIалуцун тIаде щварал гIадамал, вехьассдеги хьандолаго, нахъ руссун руго. ГIемер кватIичIого, вехьассул гIиялълъ речIчIун руго бацIал. КигIан цIакъ вехьасс гьарай бачаниги, цо гIадамасс гIин тIамун гьечIо. БацIазги лълъикIаб хъвехъари гьабун буго. Вехьассго гIадал ххвелал гьарулел рукIаралила, жив гIуруцца восун унев вугилан, цо гIолохъанчияссги. КIиабизе, унго-унголъун гIуруцца восун унеб меххалълъ, лълъиццаго бер тIамичIебила гьессухъги. 79. Цо гIила гьечIого, гIадан мискинлъуларо. 80. Цо гIила гьечIого, нухда моххмохх лъоларилан абурабила царацца. 81. Цо гIила гьечIого, цIцIад балареб, цо гIила гьечIого, бакъ щолареб. 82. Цо гIиялълъажо хъунги, бертин гьабейила, цIцIалкIу кIутIунги, берталълъ роххел загьир гьабейила. 83. Цо гIункIкI царгъикь гьабулебила, цо гIункIкI авлахъалда гьабулебила. 84. Цо жо бикъарасс кинабго бикъарабиланги кколеб, цо гьересси бихьарассул кинабго гьерессиянги кколеб. 85. Цо жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ гьедигIан кIудияб мухь кьеларин дуццаян абурабила бакьучалълъ бацIида. БацIицца бакьуч гуккулеб букIанила, жиндир анцIгониги кьарияб куйги бугила, мун квине ракIалдецин ккезеги ккечIила, бачIайила картIинисса къватIибе. Гьедин батани, жиб щибизейила къваригIун бугебилан чIчIанила бакьуч. Жинда давла батун бугин, гьеб жиндир добе бехъерхъизе кумек къваригIун бугилан абунила бацIицца. Жинцца дуе бащдаб давлаги кьелила. - Валагь, бачIинаро! – ян абунила бакьучалълъ. – Цо жо ракIалда гьечIого, гьедигIан гьитIинаб хIалтIухъ гьедигIан кIудияб мухь кьеларо дуцца! 86. Цо каранда кIиго ракI букIунареб, цо кIазикь кIиго бетIер букIунареб. 87. Цо кваритIа кIиго палугьан кьурдуларев. 88. Цо квералълъ гарацIцI бухьунареб (цо квералълъ хъат чIвалареб). 89. Цо квешаб гIамал гьечIого, чи бечелъуларев. 90. Цо ккалараб мугьалълъ цогидабги хвезабулеб. 91. Цо ккве, цер ккве. 92. Цо куйдул рехъен лIугьунаро, цо гъотIол ах лIугьунаро. 93. Цо къадарав чиясс бодаго къадараб цIцIар чIвалеб. 94. Цо къвачIа кIиго гьабихъ балареб. 95. Цо къоялълъ дудаго хIехьезе кIолареб жо гIумруялълъго хIехьезе тIамугеян гьарун буго вокьуларессе кьолей ясалълъ инссуда. 96. Цо къоялълъ гIодор чIчIани, кIиго къоялълъ хIалтIизе кколел. 97. Цо къоялълъ нахъбахъун тараб жо – нусго къоялълъ нахъбахъун тараб жо. 98. Цо къоялълъ ццебе бекьараб анкьицца ццебе баккулеб. 99. Цо кьабун бекичIелда цоги кьабе. 100. Цо кIалзул хIухьелгицин кIиго батIияб - гьохьани бахьараб, пуни цIцIорораб. 101. Цо кIатIи гьечIого, тIамах гуруларо, цо гIила гьечIого, гьумер багIарлъуларо. 102. Цо кIовокIе, кIкIвахI реххизе кIолорищан, кIвечIони, хвараб дур хIалтIи. 103. Цо кIудиялдасса кIиго гьитIинаб бергьунеб. 104. Цо кIудиялдасса кIиго рекъараб лълъикIаб. 105. Цо лахIзаталда жанив бахIарчиги вахъунев, цо лахIзаталда жаниб чилъиги холеб. 106. Цо лъалиниб кIиго хханжар лъолареб. 107. Цо мокъида кIиго хIелкил бакъан рекъоларо, хIал рекъоларел росс-лълъадул ригьин ххалат ххутIуларо. 108. Цо натIицца тIупила, тIеренчедалълъ юкъила. 109. Цо нухалълъ ваччулев чи, хIатIал ххадур рехъерхъани, тIокIав ваччуларев. 110. Цо нухалълъ дур узденг ккурассул кIицIцIул дуццаги ккве. 111. Цо нухалълъ къун чIчIарав къого нухалълъ къун чIчIезе кколев. 112. Цо нухалълъ мекъи ккезегIан, лъабго нухалълъ гьикъун лълъикI. 113. Цо нухалълъ чинхъани, ссабру гьабе, кIиабизе чинхъани, ххеххлъи гьабе. 114. Цо пайда камураб квешлъи букIунареб. 115. Цо рагIи гIоларессе нусго рагIиги гIолареб. 116. Цо рагIудалъун тIубалеб калам кIиго рагIудалъун бицунге. 117. Цо рагIуе цо рагIи гIолеб, цо бакIалдассан цо ригьин гIолеб. 118. Цо рагIул чанго магIна букIинеги бегьулеб, чанго рагIул цо магIна букIинеги бегьулеб. 119. Цо рекIелI кIиго рокьи гьунареб. 120. Цо рекIелI кIигояссе бакI букIунареб. 121. Цо речIчIараб гIужда щвечIони, кIиабизеги речIчIе. 122. Цо речIчIаралълъ кIиго чIварав. 123. Цо речIчIе, гIужда щвеледухъ речIчIе, цо кьабе – ресалда ххадуб ккеледухъ кьабе. 124. Цо росулI цо гIабдал гIун вугилан абурабила ХIажихIума – дибирасс. 125. Цо рузманалълъе цо ххутIба гIолебила. 126. Цо сагIаталълъ ссабру гьабе, мунго бахIарчи вахъине. 127. Цо сон бараб меххалълъ гIорцIмада цо лълъикIаб гIамал кIочон толебила, кIиго квешаб гIамал лъалебила. 128. Цо сордо гурищилан, гъадил гIумру гъотIода арабила. 129. Цо сусур тIезеги гьелда рекъараб захIмат къваригIунеб. 130. Цо тоххаб рагIиялълъ нусго гIакъилаб рагIи хвезабулеб, цо гьерессиялълъ нусго битIараб хвезабулеб. 131. Цо тушманги – гIемеравила, нусго гьудулги – дагьавила. 132. Цо тIуни щиб болъонидасса рас, кIиго тIуни щиб. 133. Цо ххинкI бикьун кьезеги чIчIужу йикIун лълъикIила. 134. Цо ххунзахъев гьечIого, боги буцIцIунаребила, кIиго ххунзахъев гьоркьове ккани, боги биххулебила. 135. Цо хъамураб хъандие гIолареб, цин чияссде ккун, чи ххутIуларев. 136. Цо хъатIикь кIиго хъарпуз ккуни, кIиябго бортун унеб. 137. Цо хъатикь – цIцIам, цо хъатикь – цIцIал. 138. Цо хIай букIунареб, кIиго чи бергьунеб. 139. Цо хIал ккве, гьоркьохъеб ккве. 140. Цо чиги бо букIуна, богIанаб ракI бугони, боги рехъен букIуна, чахъабилъун ругони. 141. Цо чияссул боцIцIудалъун кIиго гьудул вахъунарев. 142. Цо-цо тушман камурав бахIарчи вукIунаро, Гьудул гьалмагъ тIагIарав цониги ватуларо. 143. Цо цIцIогь гьабурасс анцIабилебги гьабулеб. 144. Цо цIулал – раххан, цо маххул – газа. 145. Цо цIураб бугьнаццаги лал лIугIулеб, цо тIамураб галуццаги мегIер бегулеб. 146. Цо чахъдадасса кIиго тIехь бахъулареб, цо бахIарчи кIицIцIул холарев. 147. Цо чахъдае – квар, кIигоялълъе – тIил. 148. Цо чахъу кIанцIаралълъуссан киналго кIанцIулел, цо чиясс гьабураб жо киназго гьабулеб. 149. Цо чиясс гьабураб къадараб жо нусгоясда бихьулеб, азаргояссда рагIулеб. 150. Цо чиясс гьабураб хIалихьатаб жоялъ росуго ссурулеб. 151. Цо чиясс росу берцин гьабулеб, цолоцца къед берцин гьабулеб. 152. Цо чиясс ячарай кIиго чIчIужу – цо лъалиниб лъураб кIиго ххвалчен. 153. Цо чияссги бо буцIцIунеб, цо чияссги бо биххулеб. 154. Цо чияссда бицараб – ххалкъалдаго бицараб жо. 155. Цо чияссе кIиго чиги бойила. 156. Цо чияссул бахIарчилъиялълъ ЦIцIор бахъиларо. 157. Цо чияссул бо гIоларо, цо гьецIцIол си гIоларо. 158. Цо чияссул боцIцIудалъун кIиго гьудул вукIунарев. 159. Цо чIчIаралълъуб кIигоги чIчIун. 160. Цо чIваралълъ хъумур гIорцIцIуларебила. 161. Цоги – гIемер, азаргоги – дагь. 162. Цогиязул адаб гьабунгутIи – жиндирго адаб гьабунгутIи. 163. Цого вас – рукъалълъул ххан. 164. Цого вас эбел-инссуе Аллагь-аварагила. 165. Цого жо кIицIцIулги бицунге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гъоркье гIинги ккоге. 166. Цого инссул анцIабго лъимерги анцIго батIияб ххассияталълъул рукIунелила. 167. Цого иш гIемер буго, бечедассе цIцIар щолеб, Гьебго иш гIелму буго, мискинчи инжилъулеб. 168. Цогърониб гъваргъвар гурев, гъабуда делдел гурев. 169. Цогърониб гьури барай, гьороб бакъ барай. 170. ЦохIо бугеб бечеги тIехI бараб буго. 171. ЦохIо гIонкIкIоццаги хвезабулеб зобгIанассеб чIагIдал рагI, цохIо чияссги хвезабулеб ххалкъалълъулго рахIат. 172. ЦохIо килищ къотIани, тIолабго черххалда унтула. 173. ЦохIо мугьалъги цIцIалеб цIцIадиро цо рахъалде. 174. ЦохIо цIияб кици лъазеги годекIаниб къо реххейила. 175. Цо-цо бергьенлъи къеялдасса квешабги букIунеб. 175. Цо-цо гьересси оцол багьаябги букIунебила. 176. Цо-цо къоялълъ цо-цо рагIиниги лъачIони, хIамилгIанги гIундул ххалалъулел. 177. Цо-цо кIалзул ссадакъа кверзулалдассаги къиматаб букIунеб. 178. Цо-цо меххалълъ квешаб гьойги лълъикI хIапдолебила. 179. Цо-цо меххалълъ чияссул гьоко гъоркьа тIадеги гирула. 180. Цо-цоккун бищараб хьодол мугьалъги къали цIолебила. 181. Цо-цоккун тIинкIулеб лълъел къатIраялълъги гамачI борлIулеб. 182. Цо-цоккун тIинкIулеб лълъел къатIраялълъулги къечI хьвазе гIураб лълъим лIугьунебила. Цо гIолилав гIелму цIцIализе рикIкIаде ун вукIун вуго. Къоял ун руго, моцIцIал ун руго. ГIолилассда ракIалде ккун буго: унеб заманги бугила, цIцIалиялдассан жиндие гIураб лъайги щолеб гьечIилан. Реххун тун цIцIалигун, раччун тIахьазул цIурал ххулжалгун, рокъове вачIунев вукIун вуго. БухIун щун бакъги букIун буго, бакъван гIолилассул щекIер-мукъулукъги букIун буго. Нухдани ицц-лъар бугеб бакI батун гьечIо. Аххирги гьав щун вуго лълъел къатIраби тIинкIулеб цо кьурда ццеве. ГIодор ххулжалги лъун, гIолиласс тIинкIулеб лълъеда гъоркье дангъура ккун буго. Заман гIемер аниги, гьассие къеч хьвазе гIураб лълъим щун буго. - ВахI! – ан пикру гьабун буго гIолиласс. – ГьадигIан лъедерго тIинкIулел къатIрабазул къеч хьвазе гIураб лълъим лIугьунеб буго. Къол цо-цо рагIи лъазабуни, дие гIураб лъай щвезеги бегьулагури! ВукIарабго бакIалде нахъ вуссун вуго вас. ЛълъикIав гIалимчи вахъун гурони, рокъовеги вачIун гьечIо. 183. Цо-цониги гIайиб хханассул ясалдаги кколебила. 184. Цо-цониги гIакъилаб жо гIабдалассги бицунеб. 185. Цо-цониги гIакъилги мекъи кколевила. 186. Цо-цониги оцол багьаябги букІунебила гьересси. 187. ЦоцIцIул бицани – берцинаб, кIицIцIул бицани – мухьучIаб. 188. ЦоцIцIул кIодолъулевила чи, кIицIцIул гьитIинлъулевила. 189. ЦоцIцIул кIусизе кIкIухIаллъарав кIицIцIул кIусизе кколев. 190. ЦоцIцIул рижула, кIицIцIул хола. 191. Цояб бер беццассда кIиябго бер беццасс беццук-беццукилан абурабила. 192. Цояб бералълъе цояб бер бокьичIогойила гьоркьоб мегIер бижараб. 193. Цояб бихьичIого, цояб лъаларебила. 194. Цояб гьабулаго, цогиябги кIочон тоге. 195. Цояб квер лIулIачIого, цояб квер бацIцIунареб. 196. Цояб сон цояб соналълъул лагъ. 197. Цояб хъат данде къан, цояб гъоркье кквечIони, магIарухъ бетIер бахъулареб. 198. Цояб цоялда релълъараб мегIер букIунареб, цоял цоязда релълъарал лъимал рукIунарел. 199. Цояв виххичIого, цояв вуцIцIунарев. 200. Цояв гIабдал вугони, дандиявгIаги цIцIодорав вукIине ккола. 201. Цояв гIорцIцIун кIанцIолевила, цояв вакъун кIанцIолевила. 202. Цояз гIуцIцIулеб дуниял, цояз биххулеб. 203. Цоязе – ххунги ччунги, цогиязе – ччузецин щолареб дуниял. 204. Цоялда тIад кIиго лъе, кIигоялда тIад лъабго лъе (къадахъанассул кици). 205. Цоялда тIад кIиго лъуни, лъабго гIола. 206. Цояссе – авалалда, цояссе – аххиралда. 207. Цояссе – цIа, цояссе – кIкIуй. 208. Цояссул бер цIцIодораб, цояссул квер цIцIодораб. 209. Цояссул ххвалчен бакIаб, цояссул зар бакIаб. Цо рес къотIараб меххалълъ, бодуе хъвезежо кьеян гьарун, ХIажимурад живго ун вуго гІухьбузухъе. Жиндихъе вачIарав чи щивали лъачIев вехьасс гьессухъ гIин тIамун гьечIо. ХIажимурадги гьевги рагъизеги ккун руго. ЛълъикIго зарал вехьассдаги щун руго, дагьалги цIцIикIкIун ХIажимурадидаги щун руго. Валлагь, бахIарзал, заруе ХIажимурад ххвалчадуе гIадав ватичIилан гьалмагъзабазда бицараб меххалълъ, ХIажимурадил рекIарав КIудияв Таймасханицца ХIажимурадие гьаб кици тIамун буго.

  • e | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Ш ^ Шагь гIадаллъун ватани, Дагъистаналълъул ххалкъалда данде рагъде виччай. Шагьи гуронани, гIарацги щвечIев, цо гIанкIу гурони, боцIцIиги гьечIев. Шагьи кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре. Шагьиялда бараххщарасс гъурущ бичизе кколеб. ШантIулида бадибе чугIанги валагьичIила. ШантIулил букIун буго цIакъ гIамаликъаб чу. Гьелълъул мекълъи тIагIинародай, кIалцIи цIцIикIкIинабуниян ккун буго ШантIулида. КIалцIи-ххерни цIцIикIкIинабураб чу дагьабги ссогIлъун буго.

  • tz | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЧIчI Z 1. ЧIчIараб гьабицца гIатI ххунареб. 2. ЧIчIараб лълъим махIцинчIого ххутIуларо. 3. ЧIчIарассул малъ кIутIулареб, кIалъаларев мекъи кколарев. 4. ЧIара-хьарав гурев бихьинчи – ритIучIил хIацIцIу. 5. ЧIчIарацца – рахь, чуруцца – нах. 6. ЧIчIегIераб букIа, хъахIаб букIа, гьой буго гьой. 7. ЧIчIегIераб гIакдалги букIунеб хъахIаб рахь. 8. ЧIчIегIераб щакъиялъин хъахIаб кагъат басунеб, чIчIегIераб тIурччиялълъин багIармесед биунеб. 9. ЧIчIегIералда чIчIегIерабилан абизе, хъахIалда хъахIабилан абизейин кIал букIунеб. 10. ЧIчIегIергIоралълъ бачIараб БагIаргIоралълъ гъанкъулеб. 11. ЧIчIикIизегIан гьуинавги вукIунге, туйзегIан кьогIавги вукIунге. 12. ЧIчIинкIилассдасса гIабдалго лълъикI. 13. ЧIчIинкIилассе дагьаб лъаниги гIолеб, гIалимчияссе дагьабги лъазе бокьулеб. 14. ЧIчIужу абилалде, цо духъгоги валагье. 15. ЧIчIужу бараххщарай лълъикIай, росс саххаватав лълъикIав. 16. ЧIчIужу берцинай йикIин россассе рецц гуро. 17. ЧIчIужу гIакъилай яче, гIадалаб гIанкIуялълъ цIцIодораб хоно гьабулареб. 18. ЧIчIужу егани, рукъ бегулеб. 19. ЧIчIужу ецце, ячун къого сон бараб меххалълъ. 20. ЧIчIужу инжит гьаюлев чи – Аллагьассул тушман, ятим къварид гьавулев чи – Аллагьассулги ххалкъалълъулги тушман. 21. ЧIчIужу квешассул мегеж ххеххго хъахIлъулеб. 22. ЧIчIужу къокъай йигониги, нодо чIвазегIан гIодове къулунги, гIакълу дандбай. 23. ЧIчIужу лълъикIаб рукъ лъазе годекIанире ралагье. 24. ЧIчIужу лълъикIав росс – лълъикIав, чIчIужу квешав росс – квешав. ЦоцалI лълъикIав кIиго ваццги гьезул хъизаналги рукIун руго. Цояв вацц жиндирго чIчIужуялда ццеве веццарун вуго жал гIадал цоцалI гьуинал ваццалго ругодаян. Лълъил гьунарилан дуда гьеб кколебилан гьикъун буго чIчIужуялълъ. Нижер гьунархха! – ян жаваб кьун буго россасс. Ун руго къоял. Гьазул бакIалде вачIун вуго гъов цояв ваццассул гьитIинав вас. Гьассул чIчIужуялълъ жиндирго васассеги ваццассул васассеги кьун буго цо-цо гIанкIудул хоно. Азул вас гъове араб меххалълъ, дандияй нусалълъги кьун буго кIиявго васассе цо-цо хоно. Гьанже ццебеккун ханал кьурай гаргадун йиго жиндирго ваццассда - «Балай бихьизе, дицца дур ваццассул васассе хоно кIудияб кьуна, нилIерассего гьитIинаб кьуна. Дур ваццассул чIчIужуялълъин абуни, жиндирассего кIудияб кьун буго!». Ваццассда захIмалъун буго жиндир васассе гьитIинаб хоно кьей. Гьелдалъун кIиявго ваццассда гьоркьоб кьал ккун буго. «Ле, лълъикIав чи!» – ян абун буго чIчIужуялълъ жиндирго россассда, – ГIанкIудул ханил кIодолъи-гьитIинлъиялда тIад вагъулев чийищ лълъикIав чиян веццарулев вукIарав? Россассул лълъикIлъи-квешлъи чIчIужуялда барабин букIунеб!». 25. ЧIчIужу мадугьалассул лълъикIайила берцинай. 26. ЧIчIужу рекъарай нусги щвечIо, вас рекъараб чуги щвечIо. 27. ЧIчIужу хварав къасси гIодулевила, оц хварав къад гIодулевила. 28. ЧIчIужу хвей – цо балагь, чIчIужуйилан цоги балагь, тIаде ккей – кIиго балагь. 29. ЧIчIужу чияр берцинай лълъикI, чу нилIерго берцинаб лълъикI. 30. ЧIчIужу ячани, чIчIужу щола, россассе ани, росс щола. 31. ЧIчIужу ячарай гIолареб, чIчIужуялълъе россги къваригIунев, руссунги къваригIунеб. 32. ЧIчIужу яче, чияе инчIей, чу босе, чияца рекIинчIеб. 33. ЧIчIужу ячин – моцIцIил роххел, гIумруялълъул ургъел. 34. ЧIчIужу ячине – херав, хвезе – бахIарав. 35. ЧIчIужу ячунге чадил мучари гьабулей. 36. ЧIчIужу ячунелълъулги чу босулелълъулги, бералги къанщун, Аллагьассде божилъи гьабе. 37. ЧIчIужуги йикIуна, чIчIужукIги йикIуна, щагIил рекелги йикIуна. 38. ЧIчIужугун вагъани, чехь тIеренлъула, росугун вагъани, рукъ нахъе ккола. 39. ЧIчIужугIадан йигила цIцIорол тIагIел, чIинкъани рукъи базе бегьулареб. 40. ЧIчIужугIаданалдасса къадарав бихьинчиги вукIунев, бихьинчияссдасса цIакъай чIчIужугIаданги ятулей. 41. ЧIчIужугIаданалълъул гIакълу квенчIчIелтIа букIунебила, гьей тIаде яхъингун, бортунги унебила. 42. ЧIчIужугIаданалълъухъ ралагьизейила берал рижун ругел. 43. ЧIчIужуквешил гьобол воххун унарев. 44. ЧIчIужуялда гьикъейила, гIаксса гьабейила. Кици буго буссурбабазул ххалкъазда гьоркьоб цIакъго тIибитIараб. Бихьиназдассаги лълъикIал руччаби, руччабаздассаги къадарал бихьинал рукIунеллъи, ххассго руччаби рукъалълъул магIишаталълъул цIакъал гIуцIцIарухъаби рукIинги лъалаго, магIарулаз гьаб кици битIухъ гьабулел маргьабиги рицуна: Россасс чIчIужуялда гьикъарабила жив гъоркье кIанцIилищилан. ЧIчIужуялълъ абурабила кIанцIугейилан. КIанцIаравила росс – бекарабила бохх. Цинги, битIун гьел къоязда жаниб, рагъ-кьалги багъарун, росдал киналго бихьинал тIагIаралила. НилIер рекъав багьадур, “Куличияссул хIелеко гIадин”, росдалго руччабазда гьоркьов цохIо ххутIаравила. Цо чиясс дибирассда гьикъарабила руччабаз малълъараб жо гьабизе бегьулищилан. Дибирасс чIван къотIун жаваб кьурабила бегьуларилан. Валлагь, дибир, жив витIун ккун вугилан абурабила суал кьурасс, чIчIужу йикIанила дуе дагьаб нахги ханалги росейилан. Жинцца росичIила. «ВахI! – ан бетIер хъассанила дибирасс. – ГIакъилай чIчIужуялълъ малълъараб цо-цо жояли гьабизе бегьулеб букIараб». 45. ЧIчIужуялда гIадин, росс лъаларевила. 46. ЧIчIужуялда кьабулебги якьадалда щолеб. 47. ЧIчIужуялда рихарав чияссулгун гьалмагълъи гьабуге. 48. ЧIчIужуялда щакдари – россассул гIайиб. Росс щакдаризави – лълъил гIайиб? 49. ЧIчIужуялълъ алжан гьедун босулебила. 50. ЧIчIужуялълъ россассда абурабила мегеж ххалатав чияссда гIакълу букIунарилан рагIанилан. Россасс чIчIужуялдаги абурабила, мегеж гIакълу гьечIезул ххалатаб букIунебани, руччабазул мугжул, хIатIикье ккун, тIутIулел рукIинаанилан. 51. ЧIчIужуялълъ россассда гьикъарабила гьан киб баххчилебилан. Россасс абурабила гьанада цIцIар хъван букIунарин, цIцIоко тIагIинабеян. 52. ЧIчIужуялълъ россассул хIал лъабго нухалълъ бихьулебила - ячиндал, лъимер гьабидал, херлъидал. 53. ЧIчIужуялълъ росслъи гьабиги – дурго гIайиб, васасс эменлъи гьабиги – дурго гIайиб. 54. ЧIчIужуялълъе бокьани, хIамилги бихьинчи гьавулевила. 55. ЧIчIужуялълъул багьаяв гьечIев россги вукIуневила, анцIго россассул багьаяй чIчIужуги йикIунейила. 56. ЧIчIужуялълъул рокъов вукIинегIан, гамаги тIерхьун, тIад босун ххутIараб хъорщодаго лълъикI. Гамаги ралъдалIе тIерхьун ун ххутIараб цо хъорщода лъедолел рукIун руго эменги васги. Гьанже нилIедасса кIудияб къварилъиялда щивниги вугодаян гьикъун буго васасс инссуда. НилIедасса кIудияб къварилъиялда вугин чIчIужуялълъул рокъов вугев россилан абун буго инссуцца васассда. 57. ЧIчIужуялълъ рукъ къачIайдал, рацIцIалъигIаги россассги цIунизе кколеб. 58. ЧIчIужуялълъе зар кьолев, йокьулелълъе ракI кьолев. 59. ЧIчIужуялълъе я росс къваригIуневила, я руссун къваригIунебила. 60. ЧIчIужуялълъукьа хIинкъи – рукъалълъе ххайир. 61. ЧIчIужуялълъул бечелъи – сахлъи. 62. ЧIчIужуялълъул лълъикIлъи – хIалрекъей. 63. ЧIчIужуялълъул надалда иту бахъизе ккани, хвана хIалтIи. 64. ЧIчIужуялълъухъ тараб мегеж – чIчIужу ялагьизе лъураб тIагъур. 65. ЧIчIун букIараб хIамицца хIунссун мегIер бегуларо. 66. ЧIчIун вукIинегIан, гважи буххулев вукIинги лълъикI.

  • gh | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    ЦIцI ~ 1. ЦIцIад байдал биччараб бакъ щвейдал бакъвалеб. 2. ЦIцIад бан ххадуб буртина хIажалъулареб. 3. ЦIцIад бачIони, рукъ гIекколаро. 4. ЦIцIад хIаллъани, рокъове, бакъ хIаллъани, гьорове. 5. ЦIцIад чIчIун ххадуб дугъ кIочарав, рещтIун ххадуб чу кIочарав. 6. ЦIцIадакьаги ворчIун, гонгикье ккана. 7. ЦIцIадакьаги лIутун, гонгикь чIчIарав. 8. ЦIцIадал барти – буртина, гьорол къолден – къехь. 9. ЦIцIадал къалиялдасса бакъул ссахI бергьунеб. 10. ЦIцIадал къоялълъе бакъул къо камулареб, лабалда хуралълъе цIцIадал къо камулареб. 11. ЦIцIадал сон бакъараб, бакъул сон гIорцIцIараб. 12. ЦIцIадалаб сон ххарилаб, бакъулаб сон хурулаб. 13. ЦIцIадалабги гьекъана, бакъулабги къулчIчIана. 14. ЦIцIал кьун гIоларессе, чу кьуниги, гIолареб. 15. ЦIцIалани, гIелму щолеб, хIалтIани, боцIцIи щолеб. 16. ЦIцIаланщинав чи Къудукьа Мусалав вукIунарев, кьалде анщинав ХIажимурад вукIунарев. 17. ЦIцIаланщинав чияссул гIалимчи вакъунарев: цо-цо гIалимчиги вукIунев, цо-цо цIцIалунчиги вукIунев, ххутIарал чIчIинкIилалги рукIунел. 18. ЦIцIалараб гIоларебила, цIцIалкIизеги кколебила. 19. ЦIцIаларассда гIелму лъала, бихьарассда дунял лъала. 20. ЦIцIалацца буххугейила жиб, кIалцIуцца буххеян абулебила чоцца. 21. ЦIцIалдохъан лълъикIав вугилан, мекъсса кьураб жавабалълъе лълъикIаб къимат лъолареб. 22. ЦIцIалкIал рекьарулел, гьакьал лъилъарулел. Абиялълъ бицунеб буго цоцазде гIагарал кIиго магIарул росдал рикIкIадаб тIабигIаталълъул (рии чIчIейгун рекьуда байбихьулеб ЦIцIалкIитIа росдалги, гьебго заманалда нилъ бегьулеб Гьолокь росдалги). Гьелдаго цадахъ буго умумузул цо биценги. Цогидал магIарулалго гIадин, цIцIалкIалги ихдалил моцIцI хвараб меххалълъ рекьарулел рукIаралила. ЦIцIалкIитIасса цо бечедав чиясс гуржиязул довасса кквезе щварав цIияв лагъ ихдал векьаризе витIаравила. Хуриве щваравго, гьесс цо рахъ барабила, цинги, бахъун шарбалгун, рахънив гIодов чIчIаравила. Жеги ракьулIе ххинлъиго ккун гьечIилан, нахъ вуссаравила. Гьедин ун, нахъ вуссун вачIун, лагъасс хур бекьичIибила рии чIчIезегIан. Гьедин бекьи лълъикIабги батарабила. 23. ЦIцIалкIараб – росониб, цIцIалкIичеб - тIопониб. 24. ЦIцIалкIиниб камугеги, ссанкIиниб тIагIунгеги. 25. ЦIцIалкIиниб лълъимгIанги гIемераб бугила гьессул гIакълу. 26. ЦIцIалкIинисса жо тIагIани, росс-лълъадул дагIба-къецц гIемерлъулеб. 27. ЦIцIалкIицца лълъалъалареб. 28. ЦIцIалкIицца лълъим баччуге, лъаницца сали босуге. 29. ЦIцIалкIу кIутIун, кеп гьабунги, цо чед бекун, кванай гьабунги, бертин гьабичIого тогейила. 30. ЦIцIамул къали цадахъ чIчIикIичIого, гьудулассул (чияссул) хIал лъаларебила. 31. ЦIцIамул тIагIам лъаларессда лълъадал гьуинлъи лъалареб. 32. «ЦIцIам, Бичассул авараг, цIцIам»! Сулайман аварагассде киналго рухIчIаголъаби мутIигIал рукIаралила. Гьессда киназулго мацIцIги лъалеб букIарабила. Цо нухалда Сулайманицца киназего буюрухъ кьурабила цо-цо квен гьабун рачIайилан. Малълъухъе рачIаралила киналго. ЦIцIунцIцIрадулгIан тIагIам бугеб квен батичIебила. - Кин дуцца гьаб квен гьабураб? Щиб дуцца гъорлIе жубараб? – ан гьикъараб меххалълъ, цIцIунцIцIра бицинарилан лIутун унеб букIарабила. Сулайманицца, гъванкан нуцIцIаги къан, гьоркьобе ккезабураб меххалълъ, цIцIунцIцIраялълъ гьадал рагIаби ахIаралила. Гьедин нуцIцIида гьоркьоб къан букIиналъила цIцIунцIцIра бакьулIа къарабги лIугьараб. 33. ЦIцIам гьечIеб хоно, ражи гьечIеб ххинкI. 34. ЦIцIам гьечIони, гьан махIцунеб, гьури гьечIони, гьава махIцунеб. 35. ЦIцIам гьечIони, квен щай? Квен гьечIони, хIерчч щай? 36. ЦIцIар батIияб лъунилан, бацIида божиларо. 37. ЦIцIам тIамураб тIидукарщ гIадав чи. 38. ЦIцIар бахъараб бацI гIадин. 39. ЦIцIар бахъиялдасса бер бахъиго лълъикI. 40. ЦIцIар кIудияв ретIелгьечI, бетIер кIудияв гIакълугьечI. 41. ЦIцIар хисунилан, гъадил цIцIум лIугьунареб. 42. ЦIцIаруе рагIад кIудияв, гIалххуда гьаракь борххатав. 43. ЦIцIаруе ссадакъа кьурав, ссиялълъе къурбан хъурав. 44. ЦIцIваби гIемер рукIуна, моцIцI цо гурони букIунаро. 45. ЦIцIваби гIемерлъанагIан, зоб гвангъулеб, кверал гIемерлъанагIан, хIалтIи ццебе тIолеб. 46. ЦIцIвайиде бакъ щвела, лълъимацца хIетI бахъила, хIоржоялълъ бетIер бахъила, гIеркъикьан къвали баккила, къадакьан мичIчI баккила. Аби бачIун буго, ракъун ругилан лъимал зигардараб меххалълъ, эбелалълъ лъималазе бицунеб букIараб берцинаб мацIцIалдассан. 47. ЦIцIекIаб кваначIого, гьуиналълъул тIагIам лъалареб. 48. ЦIцIибил гьаркьадерил босейила, гьоло ххунздерил босейила. 49. ЦIцIикIкIараб цIцIайи мачIчIадалда лълъикIаб, гьоркьохъеб цIцIайи черххалълъе лълъикIаб. 50. ЦIцIилицIцI хвелебилан лъехьоларей, лълъим тIагIинебилан чероларей. 51. ЦIцIогь – хханассдассаги бергьараб жо. 52. ЦIцIогьги ххиянатги хабалI гурони баххчулареб (ЦIцIогьги ххиянатги хабалIги тIатунеб). 53. ЦIцIогьодун чи бечелъуларев. Цо чиясс тукадасса ххамил туп бикъун буго. Гьеб бихьарав тукенчиясс, ххадувги ун, чи ккун вуго ва гьикъун буго чахъдацца чан квегIерин гьабулеб. ЦIцIогьорасс жаваб кьун буго цо кьегIер гьабулин, нагагь-надир кIи-кIиги гьабулилан. Ххадубги бацIицца тIинчI чан гьабулебанги цIеххон буго тукенчиясс. Анкьго-микьгоги гьабулилан жаваб кьун буго цIцIогьорасс. «ВахI! – ан абун буго тукенчиясс. – Цо-цо гурони кьегIер гьабуларел чахъабазул рехъаби гIолел руго, анкьго-микьго тIинчI гьабулел бацIазул рехъаби гIолел гьечIо. Гьелълъие гIила щибдай?» ЦIцIогьор вуцIцIун чIчIун вуго. Чахъаби зарал гьечIел жал руго. БацIал цIцIогьал руго. Гьединлъидал гIадамаз гьел гъурула, гьезул рехъабиги лIугьунаро. ЦIцIогьодун чиги бечелъуларо. Ххамил тупги букIаралъуб лъе, мунги дурго нухда а! – ян абун буго тукенчиясс гьессда. 54. ЦIцIогьор бечелъуларевила, баххил кьаралъуларевила. 55. ЦIцIогьор гьедула, хъахIба гIодула. 56. ЦIцIогьор гIорцIцIуларев, гIалим вакъуларев. 57. ЦIцIогьор жиндирго рагIадалълъукьаги хIинкъулев. 58. ЦIцIогьор тIаргъил щомериялдассанги ватIа гьавизе лъалевила. 59. ЦIцIогьорассул берал мугъалда нахъаги рукIунелила. 60. ЦIцIогьоран абизе бокьичIони, бикъуге, хъахIбаян абизе бокьичIони, черхх цIуне. 61. ЦIцIогьорасс гурони, цIцIогьор веццуларев. 62. ЦIцIогьорасс жиндирго каву щула гьабулеб. 63. ЦIцIогьорассда бикъун щвараб гIурущ кепеклъун кколебила, бетIергьанчияссда бикъун араб кепек гъурущлъун бихьулебила. 64. ЦIцIогьорассе нух камулареб. 65. ЦIцIогьорассул бералго цIцIогьорал рукIуна. 66. ЦIцIогьорассул гьодил чIоло битIулебила, бетIергьанчиясс рукъалда кIулал рахан ратараб меххалълъ. 67. ЦIцIогьорассул гIадалI цIа. 68. ЦIцIодораб бералда ралъдал тIиналда бугебги бихьулеб, тоххаб бералда берзул тIелехалда бугебги бихьулареб. 69. ЦIцIодораб гIакълуялълъул калам къокъаб букIуна. 70. ЦIцIорорав ургъун вахъинегIан, гIабдалассе вас гьавулевила. 71. ЦIцIодорассул ххвалчадулалдасса гIабдалассул ххонжрол хIинкъи цIцIикIкIарабила. 72. ЦIцIодорлъи бахIарчияссеги къваригIунеб (Гулида ХIажимурад лъаларев). 73. ЦIцIодорлъиялълъул зарал гьечIеб. 74. ЦIцIолокье гъураб чодаги божуге, цIцIорове арав васассдаги божуге. 75. ЦIцIороб бицараб гьересси ИццугохIде данде бачIарабила. 76. ЦIцIоробе нух гIагараб (Ине бокьараб бакIалде нух гIагараб). 77. ЦIцIоробе унилан гъеду лаченлъиларо. 78. ЦIцIорове унев чияссда аянги абуге, унгеянги абуге. 79. ЦIцIудуцца тIутIал кколарел. 80. ЦIцIукIа жиндирго рагIадалълъукьаги хIинхъулев. 81. ЦIцIукIа къойил холевила, чIчIужугIадан, россасс тIаде цоги чIчIужу ячараб меххалълъ, холейила. 82. ЦIцIукIа рукъалълъул рахал тIаде рортун рачIиниланги хIинкъулевила. 83. ЦIцIукIа хIинкъун вукIуневила, кIуликартIиниссанги тушман вачIиневилан. 84. ЦIцIумагъудул раххчи – кьерхадул гIаламат, къватIире рахъин – роцIцIадул гIаламат. 85. ЦIцIумлъун воржарав гьанатIа рещтIаравила, гъедулъун воржарав гъоссогохIтIа рещтIаравила. 86. ЦIцIунцIцIрабазул бо гъалбацIидасса бергьунебила. 87. ЦIцIунцIцIрадул пилги гьабуге, гъалбацIил гIанкIкIги гьабуге. 88. ЦIцIунцIцIраялълъе гохIги – мегIер, дагIнил лIарги – хъинс. 89. ЦIцIуяв чи бергьунгеги, квешаб чехь къинлъугеги. 90. ЦIцIаназейилан бокьги баге, наязейилан рукъги баге. Кициялълъ бицунеб буго цIцIаниги цо ххассаб унтиялълъ хвезе бегьулел, магIарухъ наялги цин гIемерлъулел, циндаго тIагIине, гьороцца ине бегьулел жал ругилан. Цо бечедав ххарачΙиссессул рукIун руго гIемерал наялги кIудияб цIцIаназул рехьедги. Жиндир цIцIаназул рехьед рохьосса гъоркье бачIунеб меххалълъ, чуязул илхъи бачIунеб гIадаб гьаракь букIунилан веццарулев вукIун вуго гьев. Бан букIун буго кIудияб кули. РукIун руго наязе рукъзал, цIцIаназе бокьал. Нухда чуги хун, баччун гIарцуцца къачIараб кьилигун сапаралдасса вачIунев ххарайчIиссев жиндирго колоде щвараб меххалълъ, цо течIого наги тIагIун батун буго, тIагIуналъул унти щвараб гIадин, цIцIаниги гъурун ратун руго. - Гьале! Умумузул кициялълъ абухъе ккана! КIал кьураги тIоццебе квешаб пал къотIарассул! – ан абун буго гьев пакъирасс. 91. ЦIцIани гIодизарун, гIи боххизабуге (ЦIцIани гIодараб, гIиял роххараб хIалтIи). 92. ЦIцIе кIанцIаралълъуссан бурутIги кIанцIулеб.

  • z | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Э e 1. Эбел гьечIев вукIунаревила, яц гьечIев ватуларевила. 2. Эбел-инссуе гьабураб хъулухъ – дуего нухде бараб тIехх. 3. Эбел-инссуе жалго кигIан рокьулел рукIаралали лъазе, лъимер щвечIого, щивниги хогегийила. 4. Эбел-инссуе кьураб гIакъуба – дурго нухде бан тараб заз. 5. Эбел-инссуе нужецца гьабураб, нужер лъималаз нужееги гьабулеб. 6. Эбел-инссул адабгьечI жужахIалълъул тIинде реххулевила. 7. Эбел-инссул бечелъиялълъила лъимал хвезарулел. 8. Эбел-инссул дуцца гьабулеб адаб – дурго лъималаздассан дуего щвезессеб давла. 9. Эбел-инссул ракI – лъималазда, лъималазул ракI – гьаваялда. 10. Эбел-инссул талихIги талихIкъосинги лъималазулIила букIунеб. 11. Эбел-инссул хIурмат тарав ххалкъалълъе басралъула. 12. Эбел йигей ясалълъул къаданижо борххатаб. 13. Эбел йихьун, яс йосе, мицIцIир бихьун, ххам босе. 14. Эбел йихьун, яс яче, эмен вихьун, дурцц гьаве. 15. Эбел лълъикIай гурейила ячуней, жийго лълъикIайила. 16. Эбел ракI-ракIалълъ гIодулей, ххутIарал ххвалие гIодулел. 17. Эбел-лъимал тIезарулебги – мацIцI, росс-лълъади ратIа гьарулебги – мацIцI. 18. Эбел-лъималазда гьоркьоб ккараб рагIи – гIурччинаб ххарде ккараб гIазу. 19. Эбел разилъичIого, яс чIчIужулъун ячунге. 20. Эбел хвани, кьегIер ххарде буссуна, ЛълъикIав гьудул хварай ссунде чучилей? 21. Эбел хвараб кьегIер кьурде бахунебила. 22. Эбел цадахъал – царгъинире, эбел гьечIел – къватIире. 23. Эбел ясандухъан йигони, яс кьурдухъан йикIуна. 24. Эбел-эмен разияб лъимер – лIугIи гьечIеб ххазина. 25. Эбел-эмен ххер гьарулелги – лъимал, бахIар гьарулелги – лъимал. 26. Эбел-ясалда гьоркьобги меседил баргъич биларабила. 27. Эбелаб балагь бачIунгеги, ракъул къали кIутIугеги. 28. Эбелаб росуги инссулаб нухги кIочонгейила. 29. Эбелалда ургьиссанго гурев гьекъолдухъан вахъунев, жакъа парччи гьекъон, метер хъаба гьекъонила. 30. Эбелалълъ гьавичIевги вацц гIемер вукIунев. 31. Эбелалълъ еццарай ячунгейила, авал-къоноялълъ еццарай ячейила. 32. Эбелалълъ еццичIей лълъицца еццилей? Вокьулесс ячинчIей лълъицца ячиней? 33. Эбелалълъ малълъун гуро милъиршоялълъ бусен гьабулеб, инссуцца малълъун гуро устарассул вас устар лIугьунев. 34. Эбелалълъе васги вукIине кколев бахIарчи, ясалълъе россги вукIине кколев. 35. Эбелалълъе ясги вугев дун, ясалълъе россги вугев дун. 36. Эбелалълъул квешай ясги якьадалълъул лълъикIай нусги йикIунарей. 37. Эбелалълъул ракI – васассул каранда, васассул ракI – ЦIцIоралълъул мугIрузда. 38. Эбелалълъул ракI лъималазда лъалебани, гьей егараб бакIалда тIад квер бахъун гурони, кьижилароанила. – Эбелалълъул рокъой бакъ унеб бугин, Балъида цIцIал кIутIе, бахIар руччаби. - Бакъараб чехьалда къоно чIван бугин, Бакъуда цIцIал кIутIе, малаикзаби. Кицилъун лIугьарал гьал рагIаби ТIелекь росулI рижун руго. Хур нуцалчияссул букIун буго. Росдал руччаби гьессие жидеда тIадаб къо гьабулел, гьессул чIахIиял хурзал лъилъулел рукIун руго. Бакъ гIебеде балагьун бихьараб меххалълъ, хъантIарав нуцалчиясс руччабазда гьадал рагIаби абун руго. Ракъуцца хIалги гьабун, къо кидадай инаян ругел руччабазги нуцалчияссул чара хвараб гьадаб жаваб кьун буго. 39. Эбелалълъул рокьи ккечIони, ясалълъе росс щоларев. 40. Эбелалълъул рокьи ккун, яс кьурайила, инссул рокьи ккун, васассе ячарайила. 41. Эбелалълъул хIила бергьун, ххинкIал гIиссин гьарунила, лъималазул макру цIцIикIкIун, кIи-кIи цадахъ квананила. 42. Эбелалълъул цого жо – царгъиниве гъецIеро. 43. Эбелалълъул цIцIалкIил гьаракь рагIулареб бакIалда сордо баларев «багьадур». 44. Эбелалълъул цIцIалкIил гьаракь рагIулареб бакIалда сордо баларев вас, хIамил рачIчI ккуниги, кверда пинкь бахъуней къоролалълъуй яс. 45. Эбелалълъухъ гIенеккуларел ВатIаналълъеги мутIигIлъуларел. 46. Эбелалълъухъ гIин тIамуларей ясалълъ чияхъ гIин тIамиларо. 47. Эбелги ясги – расаги гIункIкIги, нусги якьадги – ракьаги нусги. 48. Эбелдахъан – асс, инссухъан – къо. 49. Эбелдахъан гIагарлъиялълъул гурхIел цIцIикIкIарабила. 50. Эбеллъун яхъине – бигьаяб жо, эбеллъи гьабизе – захIматаб жо. 51. Эбел-эмен лъималазе алжаналълъул кавабийила. 52. Эбел-эмен рукIунелила кидадай лъимал кIудиял гIелаян; лъимал рукIунелила кидадай гьел хвелаян. 53. Эгъе кьуранани, кьолбое гIолев, кьурун вуссанани, росдае гIолев. 54. Элтир бихьун, кьегIер хъве, гIала бихьун, чу босе. 55. Эмен беццав, вацц гIинкъав 56. Эмен васаб, вас эменаб къайи-ссвериялдасса цIунагийила. 57. Эмен вукIаго – бессдалал, росс вукIаго – къоролай. 58. Эмен гъоркье реххараб гьегь мунгоги херлъилалде нахъе цIуне. Хханассул бюрухъ букIун буго хIалтIул гIумруялдасса арал херал эбел-эмен, гьагьинирги лъун, кьурсса гъоркье реххеян. Гьедин киназго реххулелги рукIун руго. Цо херай эбел гъоркье реххулеб меххалълъилан бицен буго, гьелълъ васассда гьарарабила - «Ворехха, дир вас, хIатIил кьватIараб бакI тункиларедухъ реххе», – ян. Цо эмен реххулеб меххалълъ, гьесс гьабураб васигат батIияб буго. «Ворехха, дир вас, – ан абун буго гьесс, – херлъараб меххалълъ мунгоги реххизе, гьаб гьегь нахъе цIунун те!» Инссуда цIакъ ракIги гурхIун, жинццаго эмен реххарав гIадин, жиндир васасс живги реххизе вукIиналълъул ххиялги гьабун, гьесс эмен гъоркье реххун гьечIо. Хханассдасса балъго, нахъарокъов тун, хьихьун вуго. Хханзабазул букIараб гIадаталда рекъон, цо хханасс гIадамал гъоркье ралев хханассе цо оц битIун бачIун буго. Кагътида хъван букIун буго, гьаб оцол хIалалабги хIарамабги гьан батIа гьабизе лъани, жинцца дуе пуланаб росуги кьелила, лъачIони, цо росу дуцца диеги кьезе кколилан. Жиндирго ххалкъги данде гьабун, хханасс гьеб суалалда тIад ургъизе лъабго къо кьун буго. Нахъа рокъов ваххчизавурав кIудияв чиясс гьикъун буго, щайин жакъа хханасс ххалкъ данде гьабун букIарабилан. Васассги бицун буго хханассда чIван бугеб кIудияб ургъалил. КIудияв чиясс васассда малълъун буго, дуцца абейила хханассда, гьеб оцги хъун, гIадамал кваназарейин, цаби рикIараб гьанги, гIодобе реххизе биччачIого, цо бакIалде бакIаризе гьабейилан. Цинги гьеб гьанги битIейин дов хханассухъе, дуцца нижее битIараб оцода гьабгощинаб гьан хIарамаб батанин, хIалалабщинаб нижеццаги кванилан. Хханасс лъабго къоялдассан ххалкъ данде гьабун буго. Жаваб кьезе кIолев чи гьадав ваххчарав кIудияв чияссул вас гурони ватун гьечIо. Киназго гьев гIолохъанчияссул жаваб битIараблъун рикIкIун буго. Гьесс абухъе гьабураб меххалълъ, гьезул хханги дандияссдасса бергьун вуго. Нахъе-нахъеги рачIарал гьададиналго гъваридал суалазе гIакъилал жавабал гьавго васасс кьураб меххалълъ, ххан щаклъун вуго, чIчIезабун буго, гьав гIолохъанчиясс ургъарал жавабал гьал гурин, гьалда жаниб жив ххадув гъолареб цо хIикмат батизе кколилан. АсскIовеги ахIун, хханасс гIолохъанчияссда абун буго, гьал захIматал суалазе жавабал кьей дур гьунар гуреблъи лъалин дида, щив гIакъиласс дуда гьал жавабал малълъулел ратаниги, гьев чи жинда бицеян. ГIолохъанчиясс кинабго жо битIун бицун буго. Гьеб меххалълъ хханассда бичIчIун буго, хханлъи цIунизе ккани, яшавалда жаниб жидер хIалбихьи бугел херал, гIакъилал гIадамал къваригIунел рукIин. ЦIияб буюрухъ кьун буго - «Херал эбел-эмен гъоркьеги реххуге, гьезул хIурматги цIуне», – ян. 59. Эмен гьечIессдасса, эбел гьечIев цIцIикIкIун бессдалавила. 60. Эмен гьечIессул кIудияв эмен валагьуге. 61. Эмен гьобол гIадав чи, рукъалълъул хIал эбелалда лълъикI лъала. 62. Эмен къолохъан вугони, вас кьурдухъан вахъуневила. 63. Эмен къваригIунареб къо бачIунареб. 64. Эмен лълъикIассдасса живго лълъикIав лълъикI, эбел лълъикIалдасса яс лълъикIай лълъикI. 65. Эмен рихарав васассда живгоги рихунев. 66. Эмен хвеларев щив, оц хъвеларев щив! (дуцца диеги гьабичIо, дицца дуеги гьабиларо). Гьал рагIаби абула кинавго чияссда цо хIалги букIунаро, чи къваригIараб къоги щибав чияссде бащад бачIуна, балагьила духъги абураб магIнаялда. ГIемериссеб меххалълъ гьадин абула, жиндирго хIалтIи лIугIигун, чияе кумек гьабуларев, магIарулазул лълъикIаб гIадат хвезабурав хIалихьатав чияссде. 67. Эмен цин кваналев, эбел кIицIцIул кваналей, лъимал лъабцIцIул кваналел. 68. Эменали ГIакарутIа вижун ватизеги бегьула, чиясс тIасса бищизе ккола ссанагIатаб бакI. 69. Эменги дир чIвалев, бидвиххунги дун витIулев. 70. Эменлъи гьабурассе васлъи гьабе, ваццлъи гьабурассе ваццлъи гьабе. 71. Эмехваги хераб оцол ракьаялълъул. 72. Эниб бичIчIичIони, анибги бичIчIулареб (Малълъулессда бичIчIулареб жо гIенеккарассдаги бичIчIулареб). 73. Эххебе араб гIор нахъ буссунареб. 74. Эххебе араб лълъецца гьобо хIалтIулареб. 75. Эххебе битIараб хIетIе сабаблъунги кколебила росс-лълъадиялда гьоркьоб рагIи. 76. Эххебемохъалълъ рещтIа, эххедемохъалълъ рекIа. 77. ЭххеберегIел гьечIеб эххедерегIел букIунареб. 78. Эххеде валагьарав гIодов ххутIаравила, гIодове валагьарав вахъун ккаравила. 79. Эххеде ваханагIан гьури кутакаб. 80. Эххеде йорххани, рокьи бугилан абула, гIодое къулани, къинай йигилан абула. 81. Эххеде мохъалълъ – чотIахъан, чи гьечIелълъув – багьадур. 82. Эххеде реххараб тIагъур гIодобе бачIинегIанги бихьинчияссе хIалхьи лълъикIаб. 83. Эххеде реххараб тIагъур гIодобе бачIинегIанги чияссул бахIарчилъи лIугьунеб. 84. Эххеде унелълъул, нахъвуссине ккеялълъулги хIисаб гьабе. 85. Эххедераялълъ – чотIацIакъ, чияр рокъов – саххават.

  • q | ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО

    Цц C Ццебе бекьарассул хур кIудияб, ххадуб бекьарассул ссан кIудияб. Ццебе кIал биххарав кIалъан къола. Ццебе лъураб кванида щибго кIалъай гьабуге. Ццебе рукIкIен бахъун, ххадуб кун бахъун. Ццебе цIа гьечIони, нахъа рахъу кколареб. Ццебе цIакъаб чиярлъаги, нахъа цIакъаб нилIерлъаги. Ццебессеб ццебе гьабе, ххадуссеб ххадуб гьабе. Ццебеккунго ургъарав нахъа воххула, ригьда нахърател гьабичIев нахъа пашманлъула. ЦцебетIамалълъе тIил бигъараб, витIунчияссе росу хвараб. Ццебехъанлъун гъеду тани, рещтIен рощногохIда гьабулебила. Ццеве валагьун, вилълъа, нахъе валагьун, гьури биччай. Ццеве вугессул хIетIе хъущтIани, нахъияв цIцIодорлъула. Ццеве къвакIуге, нахъа чучуге. Ццеве кIанцIани, гIадалI щола, нахъа чIчIани, гъванщилI щола. Ццеве хварав мискинчи ххадув вукъула, ххадув хварав бечедав ццеве вукъула. Ццевесса инчIого, чияссул къимат лъаларо. Ццевехъан живго ццеве унев чи гуревила, цогидалги цадахъ рачунев чийила. Ццее – Ххалун, ххадув – ГIабас. Ццидадассан – ццин, цIадудассан – цIа. Ццидал къали гьекъечIесс бакъул кеп босуларо. Ццидал къали гьекъечIесс инссул росу кколаро. Ццидалав чи жанисса махIцаравила вукIунев. Ццидалассе роххел гьечIеб, баххилассе гьудул гьечIев. Ццидацца гIакълу инабулеб, ургъалицца квен тезабулеб. Ццидацца лълъикIаб жо гьабуларебила. Ццин бахъарав воххичIо, ххеххлъарав разилъичIо. Ццин бахъарав чияссда канлъи бихьулареб. Ццин бахъарай якьад цIарагI чуризе йиччаге. Ццин бахъиналълъ гIакълу унеб, гIамал кIодолъиялълъ къадру холеб. Ццин бахъун реххараб гьан гьойццаги кваналареб. Ццин бугеб цIцIодораб жо, къурассде гурони бахъунареб. Ццин къулчIчIе, къурассда тIасса лIугьа. Ццин къулчIчIи буго бахIарчилъиялълъул гIаламат.

bottom of page