top of page

﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Ш ^
-
Шагь гIадаллъун ватани, Дагъистаналълъул ххалкъалда данде рагъде виччай.
-
Шагьи гуронани, гIарацги щвечIев, цо гIанкIу гурони, боцIцIиги гьечIев.
-
Шагьи кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре.
-
Шагьиялда бараххщарасс гъурущ бичизе кколеб.
-
ШантIулида бадибе чугIанги валагьичIила.
ШантIулил букIун буго цIакъ гIамаликъаб чу. Гьелълъул мекълъи тIагIинародай, кIалцIи цIцIикIкIинабуниян ккун буго ШантIулида. КIалцIи-ххерни цIцIикIкIинабураб чу дагьабги ссогIлъун буго.
bottom of page