
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Цц C
-
Ццебе бекьарассул хур кIудияб, ххадуб бекьарассул ссан кIудияб.
-
Ццебе кIал биххарав кIалъан къола.
-
Ццебе лъураб кванида щибго кIалъай гьабуге.
-
Ццебе рукIкIен бахъун, ххадуб кун бахъун.
-
Ццебе цIа гьечIони, нахъа рахъу кколареб.
-
Ццебе цIакъаб чиярлъаги, нахъа цIакъаб нилIерлъаги.
-
Ццебессеб ццебе гьабе, ххадуссеб ххадуб гьабе.
-
Ццебеккунго ургъарав нахъа воххула, ригьда нахърател гьабичIев нахъа пашманлъула.
-
ЦцебетIамалълъе тIил бигъараб, витIунчияссе росу хвараб.
-
Ццебехъанлъун гъеду тани, рещтIен рощногохIда гьабулебила.
-
Ццеве валагьун, вилълъа, нахъе валагьун, гьури биччай.
-
Ццеве вугессул хIетIе хъущтIани, нахъияв цIцIодорлъула.
-
Ццеве къвакIуге, нахъа чучуге.
-
Ццеве кIанцIани, гIадалI щола, нахъа чIчIани, гъванщилI щола.
-
Ццеве хварав мискинчи ххадув вукъула, ххадув хварав бечедав ццеве вукъула.
-
Ццевесса инчIого, чияссул къимат лъаларо.
-
Ццевехъан живго ццеве унев чи гуревила, цогидалги цадахъ рачунев чийила.
-
Ццее – Ххалун, ххадув – ГIабас.
-
Ццидадассан – ццин, цIадудассан – цIа.
-
Ццидал къали гьекъечIесс бакъул кеп босуларо.
-
Ццидал къали гьекъечIесс инссул росу кколаро.
-
Ццидалав чи жанисса махIцаравила вукIунев.
-
Ццидалассе роххел гьечIеб, баххилассе гьудул гьечIев.
-
Ццидацца гIакълу инабулеб, ургъалицца квен тезабулеб.
-
Ццидацца лълъикIаб жо гьабуларебила.
-
Ццин бахъарав воххичIо, ххеххлъарав разилъичIо.
-
Ццин бахъарав чияссда канлъи бихьулареб.
-
Ццин бахъарай якьад цIарагI чуризе йиччаге.
-
Ццин бахъиналълъ гIакълу унеб, гIамал кIодолъиялълъ къадру холеб.
-
Ццин бахъун реххараб гьан гьойццаги кваналареб.
-
Ццин бугеб цIцIодораб жо, къурассде гурони бахъунареб.
-
Ццин къулчIчIе, къурассда тIасса лIугьа.
-
Ццин къулчIчIи буго бахIарчилъиялълъул гIаламат.