
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Хь %
-
Хьаг чIчIегIерабгIаги, хъахIал ххинкIал релъуна, щакъи чIчIегIерабгIаги, хъахIаб кагъат басуна.
-
Хьагида лълъурани, лахI бахуна, квешав чигун лIугьани, квешлъи бахуна.
-
Хьагил хIал галида лъала, рукъалълъул хIал жанив вугессда лъала.
-
Хьагил цIири гуреб цIцIогьохъе бертин, цIцIалкIил кIутIи гуреб балъгояб ригьин.
-
Хьагинире рачIел ххинкIал хьагинир ратилищила.
-
Хьагинисса гелгIанги камуларев.
-
Хьамараб дудего буссунеб.
-
Хьандон гIадамал холелани, ярагъ къваригIинароан.
-
Хьаралда рекъонила хуриссаги бачIунеб.
-
Хьаралълъуб хьараб бижулеб, питна бекьани, питна бижулеб.
-
Хьиндалаз ххинкIал бакъде рахъулелила, ражи хьонде тIолебила.
-
Хьитаз гьабураб чакмабаз кунеб.
-
Хьитал къваридав чи – нух къваридав чи.
-
Хьитал тIадго гIор бахунге.
-
ХьодолI анкьго дару бугебила.
-
Хьон къадараб хурул рижи къадараб.
-
ХьонбакIил бутIрул гIадин, цоцаздасса кьурун руссарал росс-лълъадиялда асскIобалдасса кьурул нохъодаго лълъикIила.
-
Хьонлъуда бакъваралдасса бакълъул гIатIояб лълъикIабила (цIул).
-
Хьопода кьуричIони, тIилида бекизе кIолареб.
-
ХьуйидалIго гьечIеб гIанкIкI – цIетIа лъураб гереги.
-
Хьул лъурассул хIакъалдасса цIунаги.
-
Хьул ххалат, хIалтIи къокъ.
-
Хьул – ххалатаб жо, заман – къокъаб жо (Хьул ххалатаб жо, ххиял гIемераб жо).
-
Хьул ххалатабила, хвел гIагарабила.
-
Хьулал – рахъ-рахъалде щущан, хвел – гьезде чан къан.
-
Хьулалълъул къвачIа ххалатаб жойила (Хьул ххалатаб жойила).
-
ХьуцIцIал гIемералълъур иццал гIемерал, иццал гIемералълъур лъарал гIемерал.
-
ХьуцIцIилI къараб хIамие бетIергьанчияссул гурони цIцIайи щолареб.