﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Аллагьассул берцинал цIцIарал
alahaSul bercinal ~aral
Асмау-ллагьил-хIусна أسماء الله الحسنى
жал берцинал Аллагьасул цIцIарал.
Буссинабуна Сасикьа ГIабдурахIимицца.
بۇصێنابۇنا ساسێڨا عابدۇراحێمێڛا
ТIадегIанав Аллагьасс ххирияб Къуръаналда жаниб абуна: «Аллагьассе руго бищунго берцинал цIцIарал. Нужецца Аллагьассда гьаре гьел цIцIарал гьоркьор ккун». Суратул-агIрап, 180 аят.
Цоги Аллагьасс абуна: «Аллагь жив цогояв, цоги жинда релълъарав гьечIев вуго. Аллагьассул бищунго берцинал цIцIаралги руго». Суратул-ТIагьа, 8 аят.
Жинда Аллагьассул ссалат салам лъеяв аварагасс абуна: «Унго-унголъун Аллагьассе 99 ункъоялда анцIила ичIго цIцIар буго, нусго цIцIар гIезе цо цIцIар камурал. Гьел цIцIарал лъазарурав чи алжаналде лIугьуна» – абун.
Гьел цIцIарал лъазариялълъул хIассил буго гьел магIнагун цадахъ рикIкIине лъай ва гьезул магIнаялда рекъон Аллагьассе гIибадат гьаби.
Дагьабго шархIги гьабун дицца гьел цIцIаразул магIна магIарул мацIцIалда хъвалеб буго: буссурбабаз гьел цIцIалун, гьезул пикру гьабун Аллагь разилъи тIалаб гьабиялда хьул лъун.
Сасикьа ГIабдурахIим.
Гьаб кинабго гIалам, маххлукъ жинцца бижарав, жиндие лагълъи гьабизе тIадав БетIергьан цохIо Аллагь гурони гьечIо.
اللَّهُ
1. Аллагь: абураб цIцIар буго жинцца ТIадегIанав Аллагьассул заталда (черххалда) тIоритIел гьабулеб, гьессул ТIадегIанлъиялда гьев вукIин хIакъаб букIиналда тIоритIел гьабулеб цIцIар. Гьаб цIцIар лъураб заталълъул ссипатал гIадин руго ххадуссел киналго цIцIарал. Гьаб цохIо Аллагьассда гурони лъечIеб ва лъолареб цIцIарги буго.
ٱلرَّحْمَـٰنُ
2. Ар-РахIману: дунялалълъул рокъов жиндие мутIигIассеги жиндие гIассилъарассеги лълъикIлъи ва гурхIел гьабулев, гьезие нигIматал кьолев. Цоги магIна гьабуна: жинцца дунял-аххираталълъул кIудиял нигIматал кьолев: иман - ислам гIадаб, гIакълу-лъай гIадаб, алжан гIадаб. Гьаб Аллагьассул цIцIарги ххассаб цIцIар буго, цоги щивго чияссда жиб абулареб.
ٱلرَّحِيمُ
3. Ар-РахIиму: аххираталда жиндие мутIигIал гIадамазе лълъикIлъи гьабулев ва гьезда цIцIикIкIун гурхIулев. Цоги магIна гьабуна: дунялалда гIиссинал, дагьал нигIматал кьолев абун.
Цоги гIалимчиясс абуна: Ар-РахIим абураб цIцIаралълъул магIна гъваридаб буго Ар-рахIман абураб цIцIаралдассанги абун. Гьеб Ар-РахIималълъул магIна бугелълъул дунялалдаги аххираталдаги муъминзабада жив гурхIулев, гьезие нигIматал кьолев абураб. ХIакъикъаталдаги цIакъ кIудияб лълъикIлъи ва рахIмат буго Аллагьасс муъминзабазе гьабураб жинцца гьел иман-исламалда тIоритIидал, гьелда хьвадизеги гьаридал. Аххираталда жидее нигIматазул алжаналги хIадурун ругелълъул ва кинабго нигIмат тIубазабун жиндир гьумералда ралагьи гьезие ризкъилъун гьабулевги вугелълъул.
Гьаб кIиябго Аллагьассул цIцIар гурхIел - рахIмуялда ххурххараб бугелълъул, гьеб цIцIар лъурал гIадамалги Аллагьассул ххалкъалда гурхIел-рахIму бугел рукIуна, жидеда лъураб цIцIаралълъул асар гьезие щун бугони. Аллагьассда иман лъеялда, тавбу гьабиялда ххалкъ ахIулел, гьезул хIажат тIубаялълъе жидецца яхI бахъулел рукIуна.
ٱلْمَالِكُ
4. Ал-Малику: кинабго гIаламалълъул жиндие шарик (гIахьалчи) гьечIев хханлъун жив вугев, къиямассеб къоялълъул БетIергьанлъунги жив вугев, кинабго жо жинда хIажатав, жиндие бокьаразе бокьараб жо кьолев, жиндие бокьараб хIукму-къадарги гьабулев.
Аллагьассул гьаб цIцIаралълъул магIна бичIчIарав ва гьелълъул хIакъикъат лъарав чи жиндир чорххолI чIухIи гьечIев, жиндир напсалълъе бокьараб жо гьабуларев вукIуна. Жиндир берги, гIинги, мацIцIги, киналго лугбиги Аллагь разилъи тIалаб гьабун хьвадизарулев, гьессул ццим бахъиялдасса хIинкъулев вукIуна.
ٱلْقُدُّوسُ
5. Ал-Къудусу: кинабгIаги гIайиб ва мукъссанлъиялдассан жив вацIцIадав. Инсанассулазда жиндир тIабигIат-гIамал релълъинабизе бегьуларев. Гьаб цIцIаралълъул магIна ххал гьабурав ва гьеб бичIчIарав муъминчи киналго чорокал, къабихIал гIамалаздасса вацIцIалъи тIалаб гьабулев вукIуна.
ٱلسَّـلَامُ
6. Ас-Саламу: кинабгIаги къварилъи, гIакъуба, рекIкIел бакъвай жинда щоларев, жинцца маххлукъаталълъе сахлъи, рекъел ва талихI кьолев. Аллагьассул гьаб цIцIаралълъул хIакъикъат ххал гьабурав чияссги жиндир тIабигIат гьаб цIцIаралда борцизе яхI бахъула.
ٱلْمُؤْمِنُ
7. Ал-Муъмину: жинцца муъминзаби цIаялдасса цIунулев, лагъзадерие гьабураб къотIи тIубазабулев, гьеб къотIиялълъулI жив ритIухъав, хIинкъи - къварилъиялдасса муъминзаби рикIкIад гьарулев. Кинабго маххлукъат жиндир божилъиялда ва цIуниялда гъоркь бугев, гьезие хIажатаб жоялълъе жив гъоркь чIчIарав.
ٱلْمُهَيْمِنُ
8. Ал-Мугьаймину: жинцца лагъзадерил гIамалазул хъаравуллъи гьабулев, жиндир лъаялдасса ва бихьи-рагIиялдасса щибго жо борчIун кколарев. Жиндир маххлукъаталда тIад тIубараб ва гучаб къудрат бугев. Гьаб цIцIаралълъул магIна ххал гьабурав муъминчияссда Аллагьассда гIассилъизе кIоларо, гьессие хIеларав ва мутIигIав вукIуна.
ٱلْعَزِيزُ
9. Ал-ГIазизу: жиндир къуват-гуч бергьарав, жиндасса щивго чи бергьунарев.
ٱلْجَبَّارُ
10. Ал-Жабару: жиндие бокьараб жо бокьухъин гьабизе хIал кIолев ва маххлукъаталда тIад жиндир амру-нагью билIанхъизабулев. Жинцца кинабго жо квегъарав, жинда данде вахъарав залим гьалаг гьавулев. Цоги магIна гьабуна: жинцца муъминзабазул ракIкIазе дару гьабулев, гьел сах гьарулев абун.
ٱلْمُتَكَبِّرُ
11. Ал-Мутакабиру: жиндир ссипатал ва пиша кинабго маххлукъаталълъул пишабаздасса тIадегIанав, кинабго чIухIи-рецц жиндие хIакъав.
Гьаб кIиябго Аллагьассул цIцIар ва ссипат буго Аллагьассе ругел, гьессие рукIине рекъарал. Амма гьал ссипатал лагъассул рукIине бегьуларо ва гьел ссипатал жиндилI ругев Аллагьассул лагъ жинда гьесул ццим бахъараздасса вукIуна. Гьаб кIиябго сипаталълъул бакIалда муъминчияссулI букIине ккола хIеренлъи, хIалимлъи, мутIигIлъи, чIухIи-рецц гьечIолъи. Гьаб киналго тамахал ссипатал муъминзабацца хIалтIизаризе ккола жидеда гьоркьор. Ва амма Аллагьассулги жидерги тушманассда данде гьессулалдасса цIцIикIкIараб къвакIиги, бахIарчилъиги, гьунар-къуватги бихьизабизе ккола.
ٱلْخَالِقُ
12. Ал-Ххаликъу: жинцца жо бижулев, щибго мисал-ссурат гьечIого зобал-ракьал ва кинабго маххлукъат бижарав, гьеб маххлукъаталълъул маслахIат лъан, гьелълъул тадбир гьабун, кинабго маххлукъаталълъе хIажатаб жоги жинцца бижунев.
ٱلْبَارِئُ
13. Ал-Бариъу: жиндие бокьараб жо бижизабизе ва батизабизе кIолев, гьеб ишалълъе щибго жоялда хIажалъуларев: мисал-ссурат къваригIунарев, алат хIалтIизабуларев.
ٱلْمُصَوِّرُ
14. Ал-Муссавиру: щибаб жоялълъул ссипат-ссурат бижулев. Гьаб маххлукъаталълъул щибаб жо цояб цоялда релълъараб гьечIого бижарав: щибаб жо батIа гьабизе лъазе ва щибалда ххассаб хIукму-хIалги букIине. Гьаб лъабго Аллагьассул цIцIаралълъул пикру гьабурав муъминчи цIохIо Аллагьассе гурони хIелуларо ва гьессие гурони гIибадатги гьабуларо: кинабго жо жинцца бижулев, батизабулев, гьелълъул ссипат - ссурат гьабулев БетIергьанассе гьабичIого, гIибадат цоги щибниги жоялълъе гьабизе бегьилишха?
ٱلْغَفَّارُ
15. Ал-Гъапару: жинцца мунагьал рахчулев, жив тIасса лIугьулев. Жинда иман лъурав ва жиндие гIибадат гIицIцI гьабурал муъминзабазул квешлъиги лълъикIлъиялде ссверизабулев. Муъминчияссул чорххолI букIине тIадаб ссипат буго гьаб.
ٱلْقَهَّارُ
16. Ал-Къагьару: жиндир хIалкIолъи кинабго жоялда тIад бугев ва кинабго жо жиндие квегъун чIчIезабулев. Жиндие бокьараб жо гьабизе маххлъукъ тIамулев ва кинабго жо жиндие мутIигIлъун, хIелун букIунев.
ٱلْوَهَّابُ
17. Ал-Вагьабу: жинцца чIорого, гIорхъи ва рикIкIен гьечIого гIемерал нигIматал кьолев. Жинда гьаричIого кьолев, кьураб нигIматалда данде щибго жо тIалаб гьабичIого кьолев.
Гьаб ссипатги муъминчияссе цIакъ рекъараб ссипат буго. КигIан гIемер садакъа-ххайрат нилIецца кьуниги, нилIер ризкъи дагьлъуларо; гьеб гIемерлъула ва гьелда баракатги букIуна.
ٱلرَّزَّاقُ
18. Ар-Разакъу: жинцца кинабниги рухI бугеб жоялълъе ризкъи кьолев. Гьеб ризкъи жинцца бижарав ва хIажалъи бихьун щибаб заманаялълъ гьеб жидер бетIергьабазухъе щвезабулев.
ٱلْفَتَّاحُ
19. Ал-ПатахIу: жинцца кинабго захIматаб жо бигьа гьабулев. Жинцца лагъзадерида гьоркьоб хIукму гьабулев. Жинцца гIелму ва гIакълу рагьулев, мискин-пакъирассе ризкъиялълъул рагьу рагьулев. Жинцца муъминзабазул ракIкIал Аллагь лъаялълъе рагьулев ва гьезда жанибе иманалълъул нур лIугьинабулев.
ٱلْعَلِيمُ
20. Ал-ГIалиму: жинда кинабго жо лъалев. Жиндир лъай кинабго жоялда гIамлъарав. Жинда балъгоябги загьирабги лъалев, рекIкIел хивалалги лъалев. Жиндир гIелму-лъаялдасса гьаб кIудияб маххлукъаталълъул цохIо зара гIадаб жоги балъго ххутIуларев. Инсанассе Аллагьасс кьураб гIелму цIакъго дагьаб жо гурони гьечIо. Гьеб гIелму жиндие кьурав чиясс даимго Аллагьассе рецц гьабизе тIадаб буго ва гьеб цогидазда лъазабизеги тIадаб буго, кинабгIаги чIухIи-рецц рекIкIелI биччачIого хьвадизеги тIадаб буго.