top of page

Ч x

1. Чабхъадул боцIцIи чабхъацца унеб.

2. ЧагIиги чIвачIого, чуги хвечIого, хъала бахъулареб.

3. Чадикълъи бихьаниги, чиякълъи бихьугеги.

4. Чадил къимат гьабичIессда къо квешаб бихьулеб.

5. Чадихъ гьан бичарав, дур чара хваяв,

     Чохьоцца реххарав, дур чилъи хваяв.

6. Чадицца цIунилилан цIцIодорлъи гIодоб тоге.

7. Чали гъазихъацца кколеб, гъарим пакъирасс кколев.

8. Чалуххай чIчIужу россассеги йокьулейила, росдаеги йокьулейила.

9. Чан батIияв, чан тIекъав, чан гIажизав, чан гIабдал.

10. Чан бахIарчи къосарав кухIлу бугел бераца, каранзул кIичIал ричIун, жаниве ваккизегIан. Чан меседу къосарай, къачIарал васал рихьун, къвал байдал, борохь батун, хьолбода жемизегIан.

11. Чан боцIцIи гьечIев гIалим гIодов ххутIарав, чан боцIцIи гIемерав гIабдал гIаршалде вахарав.

12. Чан гьабизе бигьаяб жо буго, чилъи гьабизе захIматаб буго.

13. Чан гьитIинаб бетIералълъ кIудияб бетIер къотIараб, чан гьитIинаб къукъа кIудиялдасса бергьараб!

14. Чан гIакъил вугев гIабдалассул малълъалда гъоркь!

15. Чан гIалимассул гIелму мискинлъиялълъ каранда жаниб ххутIараб!

16. Чан жагьилав гIабдал боцIцIуцца жаниве вачарав!

17. Чан пайдаяб иш бугеб, жиндасса чи тIурулеб, чан зарараб жо бугеб, жиб тун чи вукIунареб.

18. Чанаре рачиналде гьаби кваназаруларел.

19. Чанахъанассул гьан биццатаб, гьабигьанассул чед биццатаб.

20. Чанахъанассул пишаялда баракат букIунареб.

21. Чангит барабщинаб чу букIунаро, чухъа ретIанщинав чи вукIунаро.

22. Чанго бихьичIого, рохьобе туманкI (ГIила гьечIого чияда гIайиб чIваге).

23. Чание мегIер лълъикIаб, чодуе авлахъ лълъикIаб.

24. Чанил бице чанахъанассе, чол бице чотIахъанассе.

25. Чаницца кьуру тун буго.

26. ЧанцIцIул борцаниги, хIамил рачIалда цого натIила.

27. Чара хвани, лочноцца гъадилгун чан гьабула.

28. Чаран къвакIула бацIанагIан, бахIарчиясс къо хIехьола хIал цIцIикIкIанагIан.

29. Чаран мугъалде ккун буго.

30. Чаранги биунеб, цIел хIал батани, гамущги меххтулеб, гIемер гьекъани.

31. Чаргъеду парххунилан, бакъул нур ссвинаро.

32. Чарухъаз гьабун, чакмабаз кваналеб заман бачIун буго.

33. Чахъаби ругони, вехь камиларо.

34. Чахъабиги цIунун, бацIалги гIорцIцIун.

35. Чахъдал къинлъиялдасса куйдул багьлъи бергьунеб.

36. Чахъдал тIом ретIараб чакъал гIемераб.

37. Чахъдал цIцIолъи бихьидал, цIцIе белъарабила.

38. Чахъдацца цIцIараб цIцIеде бачунге.

39. Чахъу гIорцIцIулареб, гIорцIен къинлъулареб.

40. Чахъу чIваниги, багIарабила бацIил кIал, чIвачIониги багIарабила.

41. Чванта тIадагьлъани, гьудулзаби дагьлъулел.

42. Чвантида кIулал рарав.

43. Чвантиниб гIарац бугони, магIардаги ах гьабулеб.

44. Чвантиниб гIарац бугони, эбелалълъул къвалакьа яхъунги, яс кьолейила.

45. Чвантиниб гIарац гьечIого, базаралде инегIан, гIащтIи кодоб гьечIого, рохьове инго лълъикIаб.

46. Чвантиниб месед бугони, росулI яс камуларо.

47. Чваххулеб лълъадае нух камулареб.

48. Чваххун балеб цIцIад гIадав, щун бачIунеб гIор гIадав.

49. Черхх херлъаниги, ракI херлъулареб.

50. Черххалда гIакъуба бихьичIони, чехьалда рахIат бихьулареб.

51. Черххалда ракI чIчIоге, чи данде ккезе гурин!

52. Черххалда хIур бахинчIони, хIарччида нах бахунареб.

53. Черххалдасса гIорцIцIуге, къуваталдасса чIухIуге.

54. Черххалълъул цIцIайи цIцIадирабаз бицуна, чилъиялълъул цIцIайи мацIцIалълъ бицуна.

55. Чехь бакъарав, рукъ мискинав – умумузул къо-ассалдаса чIухIарав.

56. Чехь бакъунилан, рукъи балареб.

57. Чехь бухIуларессде рекIел ургъел бикьуге.

58. Чехь бухIун гIодани, беццаб бадиссаги магIу бачIунеб.

59. Чехь бухIун ракIалда ккураб жо киданиги кIочонареб.

60. Чехь гIорцIцIаниги, бер гIорцIцIуларев.

61. Чехь гIорцIцIарав – бер бакъарав, рукъ бечедав – ракI мискинав.

62. Чехь квешай кIалалълъе ккогеги, кIал квешай мадугьалихъе ккогеги.

63. Чехь квешасс рукъги бичулеб, ракI квешасс боги бичулеб.

64. Чехь сабаблъун бетIер ссуризе тогейила.

65. Чехь сабаблъун бетIер хварав бетIеркъотI.

66. Чехь цIезегIан кванаялълъ кIкIухIаллъи тIад гьабулеб.

67. Чехь чIвалеб жо – квен, черхх чIвалеб жо – рахIат.

68. Чехьалда рихараб жо нус гурони гьечIебила.

69. Чехьалълъ бетIер какарав бетIеркъотI.

70. Чехьалъеги черххалъеги бокьанщинаб гьабуни, чи бокьове ккола.

71. Чи вихьун, квен кьурал, чу бихьун, хер кьурал.

72. Чи вихьун, чухъа гьабе, гьудул вихьун, ракI рагье.

73. Чи вуххуге – малълъе, чу буххуге – кIалцIи бай.

74. Чи гурессда гьаруге, дурго хIурмат хунгутIизе.

75. Чи гьечIелълъув гIакъиллъун вукIиналдасса гIадамазда гъорлI гIабдаллъун вукIинго лълъикIила.

76. Чи гIемер – чи дагь, чу гIемер – чи дагь (Нагагь гурони, чу батуларо, надир гурони, чи ватуларо).

77. Чи гIемералълъуб гIакълу цIцIикIкIараб.

78. Чи гIемерлъани, гIадлу холеб.

79. Чи даражаялде, захIмат бихьун, вахунев, гIодове бигьаго кколев.

80. Чи къварид гьавурав воххун ххутIуларев.

81. Чи лъала рагIудассан, чу лъала рилълъадассан.

82. Чи лъазе бокьани, гьессие хIакимлъи кьейила.

83. Чи лъазе бокьани, гьессул гьалмагъассухъ ралагьейила (Чи лъазе бокьан, гьудул цIеххе).

84. Чи лъалилан абуге, лъороб гьецIцIо батизе гурин.

85. Чи чохьоццайила мискин гьавулев.

86. Чи хвезе бегьулев жинда чилъун вихьуларев чияссдассанги, чи хвезе бегьулев жинда жолъун бихьулареб унтиялдассанги.

87. Чи чIваларилан кьалги гьабуге, чу ссвакаларилан ахIудги рахъунге.

88. Чи чIван, балагьги бачIунгеги, чияда ццере къулизе ккарал къоялги рачIунгеги.

89. Чидай хIелиялдасса вакъи рекъон букIуна, яхI тун хьвадиялдасса къадру рекъон бихьула.

90. Чилъун лIугьине гIумруги дагьаб.

91. Чилъун лIугьинеялдасса гІалимчилъун вахъине бигьаябила.

92. Чини лъалин, ракI лълъида бихьулеб?

93. Чирахъ баканиги, чIчIужугIадан гьечIеб рукъалда нур букIунаребила.

94. Чирахъ гьечIеб рукъ – хIайван гьечIеб бокь.

95. Чирахъул канлъи гIоларессе бакъул канлъиги гIолареб.

96. Чияда базе бигьаяб жойила зигара.

97. Чияда бицараб жо – росдадаго лъараб жо.

98. Чияда божараб карщ лълъамияб букIуна.

99. Чияда велъуге, дудаго бадибчIвай бихьизе гурин.

100. Чияда гьардоге, дуццаго гьабе, гIедегIуге, лълъикI гьабе.

101. Чияда гьикъарав – гIакъил, гIакъилассда нахъвилълъарав – цIцIодор.

102. Чияда гьикъаралълъе дуцца жаваб кьоге - «ГьикъичIогобиц», – ан дудаго цIцIар лъолеб.

103. Чияда зигара базе инчIев жиндирго къварилъигун ххутIулев.

104. Чияда кверщел гьабизе лIугьарав лълъиего вокьуларевила.

105. Чияда ццебе хъат кквеялдасса хъирул къоно тIад байго лълъикIаб.

106. Чияда ццебе хъат ккурасс черхх бичула, чияе наку чIварасс намус бичула.

107. Чияда – цедер, дудаго – рокьо.

108. Чиядасса тIокIлъарассул тушман гIемер вукIуна, бажари-гьунар бугев ххашазе тушманлъула.

109. Чияде абулелълъул, дурго эбелалълъулги пикру гьабе.

110. Чияде хьамураб жиндего буссунеб, чияде абураб жиндего бачIунеб.

111. Чияе бухъаралълъуре нилIго кколел.

112. Чияе гьабураб кумек – дуего гьабураб кумек.

113. Чияе гьересси бицарасс дуеги бицунеб, чияе ххиянат гьабурасс дуеги гьабулеб.

Искандар Зулкъарнайидаги Дарвануш абулев хханассдаги гьоркьор ккаралила кIикъого къоялълъ гьоркьосса къотIичIел роркьарал рагъал. Дандеяссул къуват цIцIикIкIараб меххалълъ, Искандар хIилаялълъе ургъизе ккаравила. Искандарицца, цIцIикIкIараб къадар гIарац-месед кьезе къотIиги гьабун, Дарванушил кквезе щварав божарав гьалмагъ тIамуравила гьессда хвалил ругънал лъезе.

Боги биххун гъоркь ххутIарав Дарвануш хханассда Искандарицца абурабила - «Рецц Аллагьассе, дир квердассан гурев, дурго бищун божарав гьалмагъассул квердассан мун холев вукIин!». Дарванушица абурабила - «Дун дуда тIасса лIугьана, лълъикIав бахIарчи, диени ххиянат гьабурасс дуеги ххиянат гьабизе бугебхха!».

ГьебсагIаталълъго Искандарицца ххиянатчи гьессул хханассда ццевеги вачун чIваравила.

114. Чияе ккараб къварилъиялдасса воххарав ххалат воххун ххутIуларев.

115. Чияе нассихIат гьабун, дуццаго мунагь гьабуге.

116. Чияе рагIи бицунге, бицун ххадуб хвезе тоге.

117. Чияе хвел гьаричIого, дуего гIумру гьаре.

118. Чияеги гьабе, дуего гьабизеги кIочон тоге.

119. Чиякъасс ургъел катиде бикьулеб, вехьасс ургъел гьойде бикьулеб.

120. Чиякълъиялдасса чадикълъи лълъикIаб.

121. Чиякълъун чи ххутIугеги.

122. Чиякьа мунго къезе ххиянат гьабуге.

123. Чиякье кIалги ккоге, кIиго чиясс бицунеб жоялда гьоркьоссанги раккуге.

124. Чияр бадибе унеб рас бихьулев, жиндирго бадибе унеб чIалу бихьуларев.

125. Чияр бакI бихьичIого, нилIералълъулго къимат лъалареб.

126. Чияр бакIалде араб лочнол нилIерго бакIалда бугеб гъадилгIан къимат букIунареб.

127. Чияр бахъухъалдасса нилIерго ххинкI лълъикIабила.

128. Чияр бихьизе – канав, жиндирго бихьизе – беццав.

129. Чияр бицин буго чияр гьан кванай.

130. Чияр бициналде дургоги пикру гьабе.

131. Чияр боцIцIиялда баххиллъизе бегьулареб.

132. Чияр боцIцIутIа бер биххуге.

133. Чияр васассдасса нилIерго яс лълъикI.

134. Чияр гьанадасса нилIерго гьуэр лълъикIаб.

135. Чияр гьорохъе кьурдуге.

136. Чияр гIадалI къараб чIор – гIеркъилI къараб чIор.

137. Чияр гIайиб ккола бачIараб балагь, нилIер гIайиб ккола бачараб балагь.

138. Чияр гIайибал рицунелълъул, мукъулукъ гIатIидав, жиндирго гIайибал рицунелълъул, гIундул раххчулев.

139. Чияр гIакълу босулареб бетIералдассаги цIунаги, бетIер гьечIей чIчIужуялдассаги цIунаги.

140. Чияр гIачIар какилалде, нилIерго басидулги багьа гьабе.

141. Чияр жо бикъарассул квер цIцIогьорабила, чияр жо ккурассул кверги кIалги цIцIогьорабила.

142. Чияр жо чияе те.

143. Чияр квен гьуинав, чвантил кIал къваридав.

144. Чияр квен гьуинлъугеги, чияр рукъ гьуинлъугеги.

145. Чияр кверацца мичIчI бетIизе бигьаяб жойила.

146. Чияр квеш бихьараб тезе кIваги.

147. Чияр кумекалде хьул лъоге, хIалтIун балагье.

148. Чияр куц-бегIалълъул бициналде цин матIуялълъуве валагье.

149. Чияр къварилъи жиндего бачIиндалила бичIчIулеб.

150. ЧIияр къимат гьабуларесс жиндиргоги гьабулареб.

151. Чияр кIиго шагьи ккурав чияссул багьа – кIиго кепек.

152. Чияр мажгиталълъуб как ахIулареб.

153. Чияр маслихIаталълъ росс-лълъади рекъон чIчIоларо, гъоркьагьобоги тIассагьобоги гIадин, цоцалI ххенон, жалго рекъон ккани гурони.

154. Чияр мегеж кквелалде, дургояб къунцIейила.

155. Чияр нахуде хьул лъун, нахударахъал гьаруге.

156. Чияр оц кваналевилан дирго ссан кваналев ватана.

157. Чияр рагIи – тIохде балеб цIцIад (РагIи – къватIиб, дун – рокъов).

158. Чияр ракьалда хханлъун вукIинегIан, нилIерго ракьалда узденлъун вукIинго лълъикI.

159. Чияр ракьалда чи беццав.

160. Чияр ракI релъиледухъ, накуги чIваге, чи чилъун вихьичIого, гьаваялдеги вахунге.

161. Чияр ригьиналда гьоркьове, гIабдал гурони, лIугьунаревила.

162. Чияр риди рахьилан ккогеги, рагьтIа гIака гьечIого ххутIугеги.

163. Чияр рокъоб квен тIагIамабила.

164. Чияр рокъов вугониги, чи лъала, чияда гъоркь бугониги, чу лъала.

165. Чияр рокъов дегIенлъунги вукIунге, дурго рокъов цIцIелъунги вукIунге.

166. Чияр ролIул чедалдасса нилIерго мочол гурга лълъикIаб.

167. Чияр ссадакъаялде саххаватго хьвадулев, жинццаго къватIибеххун къараб гурга кьоларев.

168. Чияр ссурукъ бихьараб дуццаго гьабуге.

169. Чияр тIагъур бахъани, нилIерабго къвалакь кквезе ккола.

170. Чияр хурибе рак баге.

171. Чияр цIакъалдасса нилIерго къадараб лълъикIаб.

172. Чияр цIцIоб батуларо, лълъадал нах бахъуларо.

173. Чияр цIцIоб – лълъадал щар.

174. Чияр цIцIобалде ккогеги.

175. Чияр чода рекIарав ххеххго рещтIуневила.

176. Чияр чода рекIарав хIарщукъотIнов рещтIунев.

177. Чияр чороклъи бихьизабулеб килищ бацIцIадаб букIине ккола.

178. Чияр чурпадулIе цIцIам жинццаго тIамизе те.

179. Чияр чIчIужу берцинайила, чияр чу цIакъабила.

180. Чияраб ссурун бихьун, нилIго кантIаги.

181. Чияралда бер биххарав, жиндирабго цагъриниб лъурав.

182. Чияралда хъваге, дурабго цIуне.

183. Чияразул бицунаго, дургоязулги пикру гьабе.

184. Чияргун гIахьалаб гIаладай, дунго бетIергьанаб хIамадай?

185. Чиясс дуе лълъикIлъи гьабуниги, квешлъи гьабуниги, гьелда нахъа цо гъваца батулебила.

186. Чиясс чи кIодо гьавуни, кIиялго кIодолъулел; чиясс чи инжит гьавуни, кIиялго инжилъулел.

187. Чияссда рекъаралила ишалги рукІунел.

188. Чияссдасса гьессул рагIад ххалатабила, гьессул гьунаралдасса рецц-бакъ борххатабила.

189. Чияссе гьабураб лълъикIлъиялдасса кIудияб ссадакъа гьечIебила.

190. Чияссе – гIамал берцинлъи, къохьое – нах, ратIлие – цIуни.

191. Чияссе – рагIи, хIамие – тIил.

192. Чияссе ссундулго гIей гьечIебила.

193. Чияссул бахIарчилъи борохь чIвазеги къваригIунеб.

194. Чияссул бахIарчилъи – ссабру гьабизе кIвей.

195. Чияссул чилъи жиндирго хъатикь букIунеб.

196. Чияссул гIамал хIакимлъун ккедалила лъалеб.

197. Чияссул ияхI – носол бал гIадаб жо.

198. Чияссул квешаб гIамал бахунеб унтиялдасса квешаб.

199. Чияссул къунтIаб гIамал-ххассият цо рагIудассанги бичIчIулеб.

200. Чияссул кьучIлъи – рагIи, рагIул кьучIлъи – тIубай.

201. Чияссул кIодолъи рарал соназулI гуребила букIунеб, гIакълуялълъулIила.

202. Чияссул хвел чияда бараб гьечIеб.

203. Чияссул хвелгицин берцинаб букIине ккола.

204. Чияссул тушманила жиндаго лъалареб жо.

205. Чияхъе тIагIел кьезе рокъотел виччай.

206. Чияцца гьабичIелълъул бициналде, дуццаго гьабуралълъулги багьа гьабе.

207. Чияцца гьабуралълъе къимат кьезе цIакъ бигьаяб жойила.

208. Чияцца гьабуралълъул гурони, жинццаго гьабуралълъул рогьо букIунарев.

209. Чияцца гьавун, чи лIугьунарев, жинццаго живго лIугьинавизе кколев.

210. Чияцца гьумер бухIизегIан, цIадуцца мегеж чIурхIаги.

211. Чияцца гIакълу малълъун, гIабдал цIцIодорлъуларо.

212. Чияцца кьураб бищунго лълъикIаб жо – гьáричIого кьураб жо.

213. Чияцца кьураб жа гьекъеялдасса живго бетIергьанаб лълъадал рагI гьекъей лълъикIаб.

214. Чияцца чи инжит гьавуларо, цин жинццаго живго инжит гьавичIони.

215. Чияццаниги кваналел Хъилидал багIаргIечал нилIеццаго кванан лълъикIила.

216. Чода рекъаралила тIукъбиги чIвалел.

217. Чода чIвалел магIазул гъанссида чIвалел магIал гьарурав Аллагь!

Маххукъебедассул йикIун йиго цIакъ берцинай чIчIужу. Хханассе бокьун буго, гьелълъул россги тIагIинавун, жинццаго гьелдассан кеп босизе. Хханасс лъазабун буго къебедассда, метер радалалде нусго чодуе тIикъва-магI къотIичIони, жинцца мун чIвазе вугилан. Маххукъебедасс рокьукъаб ххабар чIчIужуялълъе бицун буго, кIвелародай рухI ххвассар гьабизеян хIалтIизе къассдги гьабун буго. ГIакъилай чIчIужуялълъ гьессда абун буго - дудассан тIалаб гьабулеб буго инсанассухъан гьабун бажарулареб жо. РачIа, къасси нилI регилин, метералде щиб бугониги ккелеб батила.

Цониги магIги къотIичIого, росс-лълъади регун руго.

Радакь, нуцIцIидаги тункун, хханассул нукарасс абун буго - «Ххан хун вуго, ххеххго гьессул гъанссида чIвазе магIал къотIизе тIаде вахъа», – ян.

Маххукъебедасс гьурмада квер бахъун буго, ццереххун реххссарал рагIабиги абулаго, гъанссида чIвазе магIалги гьарун руго.

218. Чодасса гьоко ццебе унеб.

219. Чодасса рещтIун, хIамида рекIун.

220. Чодуе – цIцIал, хIамие – хIенссеркIо.

221. Чое – кьили, хIамие – гъалдибер.

222. Чое хъулухъ гьабичIони, лъелго рилълъине ккола, хIама лълъикI хьихьичIони, рохь мугъалълъ баччизе ккола.

223. Чол жал кколебилан, хIамил рачIчI ккоге.

224. Чол къимат лъаларев лъелго вилълъине кколев.

225. Чол хIал, гъогъолIе бачани, лъала, чияссул хIал, сапаралде цадахъ ккани, лъала.

226. Чордезе бокьарав лълъекьа хIинкъуларев, хIалтIи бокьулев бокьун вегуларев.

227. Чорххое рахIат гIемер гьабурав нахъа воххуларо.

228. Чорххол гьава цIцIикIкIарав цо хIалалда ххутIуларо.

229. Чорххол гIамал хисугеги, рекIел гIадлу биххугеги.

230. Чорххол гIамал хисугеги, хурул талихI бекугеги.

231. Чорххол сахлъи бараб буго роццада кванаялда, рукъалълъул ракIа-раххари – босаралълъуб босараб лъеялда.

232. Чорххол тIабигIат буго, керен тIуни, батIалъун чIчIолеб, тIечIони, кидаго хахулеб лъимер гIадаб жо.

233. ЧорххолI бугонани, нилIерго рухIги, махIалда бугони, нилIерго хIалги.

234. ЧорххолI бугони – рухI, чвантиниб бугони – гIарац.

235. ЧорххолI бугони – хIал, рокъоб бугони – махIал.

236. ЧорххолI витIарассе кинабго квен татуяб.

237. ЧорххолI витIи гIадаб чода чи рекIунарев.

238. ЧорххолI гьечIеб гьунаралълъ чи ццеве тIун инаро.

239. ЧотIахъанасс чу беццулеб, векьарухъанасс оц беццулеб.

240. Чохьое ияхI гьечIев, ракъуе ссабру гьечIев.

241. Чохьоеги рихьиеги бокьараб гьабуни, иххтияр гьечIеб бакIалде кколел.

242. Чохьол бухIиялда щибго релълъунареб.

243. Чохьол гурони, мацIцI лъаларев, чадил гурони, бицунарев.

244. Чохьол гьудулзаби чанги ратулел, къваригIиндал гьудул дагьав ватулев.

245. Чохьол дару – гьан, гьанал дару – рокьи.

246. Чохьол унти тIад чIвани, ботIрол унти тIагIуна.

247. Чохьол ургъел гьабуларесс ботIролги гьабулареб.

248. Чохьониб гьунареб кIалдибги гьунареб.

249. Чохьоцца гIадин, чи реххуларо.

250. Чоцца хIатIал росулел, тIад рекIарассухъ ралагьун (Чоцца юргъаги бачунеб, чи вихьун).

251. Чоцца чал кIанцIидал, оцоеги баркала кье.

252. Чоцца чи хIурулI речIчIулев, гIорцIмацца гъогъолI речIчIулев.

253. Чу берцин гьабула кьилиялълъ, чи берцин гьавула захIматалълъ.

254. Чу щведал, кьили щвечIо, кьили щведал, чу щвечIо.

255. Чу беэдун квегъе, чIчIужу еццун куцай (Чу беэде, чIчIужу ецце).

256. Чу босе гьод къокъаб, гьалмагъ ккве калам дагьав.

257. Чу босе, юргъа бихьун, налъи гьабе, чи вихьун.

258. Чу босулесс гьелълъул рилълъин цIеххедал, чол бетIергьанасс абурабила мавлидалде ахIун унев дибирассулалдасса ххеххаб бугилан.

259. Чу гьечIелълъуб хIамаги чуйилан толебила (тейила)

260. Чу, кIалдиб ххер ккун, холеб, къарум, дунялалда ххутIанщиналда ххадув ххачадулаго, холев.

261. Чу лъала, кьолокье ккедал, чи лъала, кьалде ккедал.

262. Чу лълъикIаб чияцца рекIинчIеб, лълъади лълъикIай чияе инчIей.

263. Чу лълъикIасс чодуе хIалхьи толареб, ретIел лълъикIав хьвадулев чIчIоларев.

264. Чу рилълъадассан лъала, чи рагIудассан лъала.

265. Чу хIалае ккун, хIамие кIалцIи щварабила.

266. Чу щолаго, гIорцIен гIабдаласс гурони рекIунареб.

267. Чу щолебги букIун, хIамихъ анищ гьабуге.

268. Чу-ярагъ лълъикIавилан, лълъиданиги цIцIар лъоге, лъалабалъги ратулел тадбир бугел гIадамал.

269. Чуги чIвачIого, чиги чIвачIого, хъала бахъулареб.

270. Чуги ццебе тун, лъалкI балагьулев.

271. Чуги цIцIалги гIола гIолохъанчияссе.

272. Чудкие балкан кинаб бугониги батIалъи букIунареб.

273. Чундузул убуразулI лIар биццатаб бис гIадав, лъарал лълъимазда гьоркьов хъахIилаб ралъад гIадав.

274. Чури бухIараб бахIри гIадин.

275. Чурпадул хIал гъодода лъала.

276. Чурул росода чIван, чIулгIи бекуге (Чи гурев чияссе кьун, лълъикIай яс хвезаюге).

277. ЧурулIа бахъараб гIункIкI гIадин.

278. Чурунилан щагIил чини лIугьинаро, чол русснада бухьунилан, хIамил чу лIугьинаро.

279. Чухъида квер бахъула, хъабчиде квер хьвагIула.

280. Чуял гIемер руго – тулпар цо буго, гIадамал гIемер руго – бахIарчи цо вуго.

bottom of page