
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
Сс S
-
Ссабру алжаналълъул кIулила.
-
Ссабру гьабулеб бугилан чи валъаргъунге, си гIураб меххалълъ, биххулебин.
-
Ссабру гьаби гIоларо, рекIелI гIакълу гьечIони.
-
Ссабру гьабурассе пайда кIудияб.
-
Ссабру гьечIев чияссул гьабун жо релълъунаро.
-
Ссабру – гIакълуялълъул ххан.
-
КIудияв чиясс васассул васассда малълъулеб букIун буго, ворехха, дир вас, мун ххеххдаруге, гIакълуялълъул ххан ссабруйин кколеб.
-
ЧIчIужу ячун мехх бахъилалдего, гьев ккун вуго рагъде. Рокъове щвечIого, ун руго гIемерал санал. Гьасс пикру гьабулеб букIун буго чIчIужу жиндие ххияналъанадай, россассе анадайилан...
-
Аххирги гьав щун вуго сардилI жиндирго минаялде. Цин рокъове лIугьиналде, тIохдеги вахун, ццебетIалаялдассан рокъове валагьараб меххалълъ, бихьун буго таххида вегун цо бихьинчи вукIинги, гьессул бетIералда кверги лъун, жиндирго чIчIужу йикIинги. КIудияв инссул малълъ босичIев ххеххдарухъанасс, жанивеги лIугьун, цин хханжар кьабун буго бихьинчияссда, ракIалда букIун буго чIчIужуги чIвазе.
-
«Вай! ЧIвана гури дуцца дурго унтарав вас!» – ан чIчIужу тIад ххурххараб меххалълъ, бичIчIун буго гьессда ссабру гIакълуялълъул ххан букIин.
-
Ссабру тIагIарассухъа тIад гьабун жо босуге.
-
Ссабру ццебе ккезабе, ццин нахъе ккезабе.
-
Ссабруялда чIчIарассе пайда камулареб, ххеххдарухъанассул ххиялал хIорго ххутIулел.
-
Ссабруялълъ мегIер лълъухъалеб.
-
Ссабруялълъул тIиналда – багIараб месед.
-
Ссабуралълъул аххада - роххел.
-
Ссабруялълъул тIиналда тIогьол майдан рагIула.
-
Ссабурассе – бохх, виххарассе – ратIа.
-
Ссадакъа кье кваранаб квералълъ, кьураблъи квегIаб квералда лъаларедухъ. (Квараналълъ кьураб квегIалда лъазе кколареб).
-
Ссадакъа кье рукъ бакъулареб, хIалтIи гьабе черхх чIвалареб.
-
Ссадакъаги къадеквенги – дагьаб жо.
-
Ссадакъаялълъ хьихьулессул къадруги букIинаро, бараб гIетIалълъ тIувалессул къиматги хвеларо.
-
СсахIие жо рокъоб гьечIей, къолоде жо тIад ретIуней.
-
СсахIил пайда гьабулаго, къолол зарал ккарабила.
-
СсахIилги роцен лъазе ккола.
-
СсахIихъ ссахI гурони щолареб.
-
СсахIицца къеларо, къолоцца бергьинаро (Жо гуреб жоялълъул бицунге).
-
СсахIицца хIама цIцIараб, рахъицца оц цIцIараб (хIал щун, унтараб).
-
Ссвакарассда нух гурхIулареб, вакъарассда чед гурхIулареб.
-
СсваквачIого чIчIани, чIчIечIого вилълъине кколев.
-
Ссванилан ккараб цIа рекIинеги бегьулеб, ссванилан тараб питна цIилъизеги бегьулеб.
-
Ссвараб ххвалчен, чарххида ккуни, рекIуна; гIантав чияссулги, гIадамалълъе вахъани, мадар лIугьуна.
-
Ссверун къачIеб азбар – цаби гьечIеб кIал.
-
СсалихIицца жергъен гIадин, рекъезабе.
-
Ссан – дуе, хур – дие, бекьизе – дуе, кваназе – дие.
-
СсанкIиний лъуниги, чIчIужугIадан цIунун бажаруларей.
-
СсогIаб чу бичула, квегъуд буссунареб бугъа хъола. Малълъараб гьабуларей чIчIужуялда щиб гьабилеб?
-
СсугъралIа чиясс гьабураб жо анкьго соналдассан гурони тIатунаребила.
-
Ссугъур къан букъе, къехь биччан букъе.
-
Ссундуе букIаниги, пал лълъикIаб къотIе.
-
Ссундуего жиндир заман, ххасало-гIазу, риидал-цIцIад.
-
СсундулIго роцен букIине кколеб.
-
Ссундулго аххир букIунеб, анищалълъул бицен ххутIулеб.
-
Ссургу гIадинги вукIунгейила, жини гIадинги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила (Ссургу гIадин хъалалъанги вукIунгейила, жини гIадин гъорлIанги вукIунгейила, цо-цониги кьоххорххо гIадинги вукIайила).
-
Ссуриялдасса хвелго лълъикIила.
-
Ссурун хвей – кIицIцIул хвей.