
﷽
دۇن ماعارۇلاو وۇڬۈ
ДУН МАГIАРУЛАВ ВУГО
dun mafarulaw wugo
О o
-
Оборай елъулейила, хъахIба гIодулейила.
-
Огь! – ан абизе ккараб къо бачIунгеги.
-
Огь, бочIораб «ворчIами», чи вихьун, гаргадулеб; огь, бочIораб «ворчIами», чи вихьун, буцIцIун чIчIолеб.
-
Огь, гъарим цого чахъу, чундузул болIе ккараб,
Чабххил лълъим гьекъечIого, зумзумилан къеркьолеб.
-
Огь, мун хваяв херав чи, гъассда рукIел ссурарав;
Огь, мун хваяв херав чи, хIарччда кванай ссурарав;
Огь, мун хваяв херав чи, босноб регел ссурарав! (Херал чагIаз, херлъиялълъул квешлъи бицун, абулел рагIаби).
-
Огь, мун чIунтугеяб ГIандимегIер, тIагъургIанаб накIкI лъуниги, зобго цIураб цIцIад балеб. Огь, баркаман БергъубакI, пирпилаго цIа бакулеб, цIадабе реххун, пер бежулеб!
-
Огь, эбелалълъул ракI, эбелалълъул ракI!
-
Огьогьоялълъ гьорчIо кколаребила.
-
Ордекалълъул тIанчIида хханинибго лъалебила лълъим.
-
Охолисса бекьичIеб ххаслихъе бачIунареб (лъилъулареб).
-
Охолисса гьабичIеб ххаслихъе батулареб.
-
Охолисса карщ лълъама, ххаслихъе ххинкIал чIахIа.
-
Оц бикъидал, къоно тIамурав, къотIнове лIугьиндал, хьитал рукъарав.
-
Оц бикъун ххадуб тIамураб къанил пайда щиб?
-
Оц бихьун, рихьи бай, басиялда гIурдул рай.
-
Оц гьекъон бахъинегIанассеб заманалълъ лъалареб жо гьабизегIан, сордо-къоялълъ лъалеб жо гьабизе бигьаябила.
-
Оц гьечIев хIаликъав, хIама гьечIев рилълъакъав.
-
Оц гьечIессул рекьи хIалакъаб.
-
Оц гьечIессул хур кIудияб, хIама гьечIессул гьир кIудияб.
-
Оц гьечIессул хIалтIи бакIаб, хIама гьечIессул гьир бакIаб.
-
Оц гьечIессухъе оцги биччаге, хIама гьечIессухъе хIамаги биччаге.
-
Оц гIуниги – бече.
-
Оц гIуниги – гIолохъан, гIала гIуниги – тагьи.
-
Оц гIураб меххалълъ, гIинтIизеги ккогеги, гIолохъанчи гIураб меххалълъ, гIакълу малълъизеги ккогеги.
-
Оц кьун, барщизарула, хIелеко кьун, рекъезаруларо (Шагьи кьун, барщизаруге, оц кьун, рекъезаре).
-
Оц кьурул рагIалде къайгун, хIамида ургъел чIвалеб.
-
Оц кIанцIизе кватIани, гIака кIанцIулеб.
-
Оц лIугьунеб жо бачидаго лъалебила.
-
Оц лIугьунеб жоялълъул лIар бегIераб букIуна.
-
Оц мацIцI лъалесс бикъун батаги.
ВуцIцIун чIчIарав чияссул цIцIогь тIатIинчIого ххутIизеги бегьула, гIемерни чвархъолев кIалачол балъголъи тIатинчIого, къватIибе реххичIого ххутIуларо. Гьединлъидал абула цIцIогьорассул хIакъалълъулI гьал рагIаби. Гьалълъулго абулеб куц ккола: «МацIцI лъаларев цIцIогьор хваги, цIцIар лъаларев тушман хваги», – ян абурабги. (ЦIцIар лъаларев тушман вуго балъгояв тушман).
-
Оц тIураниги, Марямил гIайиб, релълъ беканиги Марямил гIайиб (Оц тIураниги – Марям, релълъ беканиги – Марям).
-
Оц хвани – гьан, гьоко хвани – цIул.
-
Оц хваниги, хур ххутIулеб, хур хваниги, ракь ххутIулеб.
-
Оц хIалакълъичIони, хъизан гIорцIцIулареб.
-
Оцаз гьабураб чоцца, рииялълъ гьабураб ххаселалълъ кваналебила.
-
Оцал – магIарда, МахIама – рагIдукь.
-
Оцал тIуричIони, тIегь балареб, тIаде ракь хъвачIони, хур бачIунареб.
Кици буго некIссияб. НекIо умумуз, “оцбай” абураб ихдалил рекьул байрам тIобитIулаго, гьенир гьарулаан цIакъго тIассан ккарал гIадатал. Гьезда гьоркьоссан цояб букIана хьон хьазе, рекьуда байбихьизе рахъарал херал чагIазде, гьадал рагIабиги ахIулаго, тIаде ракь хъвалеб, росдал гIиссинлъиги ххадуб тIамун, оцал тIуризабулеб гIадат.
-
Оцода бече гьабеянги абуге, гIака гьакидаги баге.
-
Оцода гъоркь бече балагьулареб.
-
Оцодаги букIунеб хIал, хIамидаги букIунеб жан.
-
Оцол гIадаб габуралълъул, тIотIол гIадаб бетIералълъул.
-
Оцол лIаран хIамил гIин ккоге.
-
Оцол тIомол бицинчIого, тIомохьитазул бицунге.
-
Оцол тIомониб бачил ракI лъурав.
-
Оцол хъири бахъинчIони, магIил хъуй бахъунареб.
-
Оцол, хIамил хIисабгьечI, хIамикIартил бетIергьан.
-
Оцолаб босе, басидулаб те.
-
Оцоцца гIанассеб хIалтIи гьабулев, хIамицца гIанассеб къайи баччулев.
-
Оцоцца цIцIалеб букIаго, гьоко ссвакалареб.
-
Оц хъвезеги бокьун гьечIо, гIака бичизеги рес гьечIо.