top of page

Авар кицаби ва абиял

ГIУРУСАЛЪЛЪУЛ  ГIЕЛМАБАЗУЛ  ИДАРА

ДАГЪИСТАНАЛЪЛЪУЛ  ГIЕЛМИЯБ  БАКI

«ХIУРМАТАЛЪЛЪУЛ  ГIАЛАМАТ»  ШАПАКЪАТ  БОСАРАБ  ЦIЦIАДАССА  ХIАМЗАТИЛ ЦIЦIАРАЛДА  БУГЕБ  МАЦIЦIАЗУЛ,  АДАБИЯТАЛЪЛЪУЛ  ВА  МАХЩЕЛАЛЪЛЪУЛ МАЛЪЛЪУ.

Авар кицаби ва абиял

 

Данде гьаруна ГIалиханазул Зайирбекиццаги, ГIалиханазул СагIидиццаги.

МахIачхъала – 2007

Ххалкъалълъул гIакъиллъи лъазе бокьани, гьелълъул кицабазухъ ралагьейила

ЦЦЕБЕРАГIИ

Кицаби, абиял ххалкъияб кIалзул гьунаралълъул цIакъго некIссияб абулеб къагIида ккола. Гьел лъалел рукIун руго дунялалълъул гIемериссел ххалкъазда. НилIер заманалде щвелалдего рукIарал ццерегоссел миссираздаги, элиназдаги, румаздаги лъалел рукIун руго кицаби. ГIурусазул некIссияб хъвай-хъвагIай «Заманалълъулал соназул къиссаялдаги» дандчIвала кицаби.

 

ГIалимзабаз рикIкIунеб буго тIоццерессел кицабазул рижи ццебе заманалда гIадамассул, жамагIаталълъул пикруялда кинал рукIаниги хъвачIел малълъа-хъваял, къагIидаби, гIадатал, къанунал щула гьаризе, кIочон течIого рукIине букIараб хIажалъиялда бухьараб бугилан.

 

Абулаанила - «КIочон тоге кьоги дореххун рахине кколеблъиги».

 

Гьелълъул магIна - нухда рахъунаго, ццадахъ гIарац босизе кIочон тогейила (дореххун рахунеб бакIалда кьодассан аралълъухъ магъало кьезе кколеб букIун буго).

Кида, кинаб заманаялда гIадамаз гIумру гьабулеб букIун батаниги, рижун рачIунел руго цадахъ гIумру гьабиялълъул къагIидаби, жамагIаталда, чияссда ххурххарал къанунал. Ракьалда кигIан батIиял ххалкъал ратаниги, жидеего ххассаб кинаб гIумруялълъул хIалбихьи гьезул батаниги, гьезул кицаби-абиязул гъорлIе раккун ххал гьабуни, нилIеда бихьула хъвалеб рахъалълъги, гIуцIцIиялълъулIги, магIна-хIассилалълъулIги гьезул гIажаибаб релълъен букIин.

 

Гьеб гьедигIан тамашалъи гьабизе ккараб жоги гуро. Гьеб гьедин букIине кколеб батила, щайгурелълъул киналго ххалкъазул рукIуна релълъарал ургъелалги, ццере чIчIарал масъалабиги, тIалабалги, тIадал жалги, рукIа-рахъиналълъул къагIидабиги, гIумру гьабизе кколеб куцги…

 

Кинабго лълъикI ккараб, битIун ккараб, берцин бихьараб ххадуссел гIелазе тезе, гьез босизе бокьараб лълъикIаб щинаб цIунизе ццере рукIараз жигарги бахъун батула.

 

НекIссиял хъвавулал хъвай-хъвагIаязда ратула гIадамаз гIумру гьабулеб букIараб куцалълъул, гьезда тIадаллъун гьарун рукIарал хьвада- чIвадиялълъул къагIидабазул, гьезул пикруялда, хъанчаздаго чIчIезарурал ва тIадаллъун гьарурал тIалабазул хIакъалълъулI. НекIссияб Гьиндалълъул «Махабхарата» хъвай-хъвагIаялда (нилIер заманалде щвелалде V гIасруялълъ ццебе букIараб) нилIеда батула гьадинаб кици - «Цогидазул ссурун бихьараб дуццаго чияе гьабуге».

Гьездаго релълъарал гIакъилал рагIаби некIссиял румазул адабияталдаги ратула - «Чияр ссурун бихьаралдасса мунго цIуне» (НекIссияб Румалълъул хъвадарухъан Катон).

Хьвада-чIвадиялълъе, рукIа-рахъиналълъе рихьизарурал ххассал къагIидаби рукIун руго Дагъистаналълъул магIарулазеги. 17-леб гIассруялда гIуцIцIун букIун буго «Аваразул хан ГIумаханассул къанунал (дандерачин)». Гьединабго къануназул букIун буго Ххайдакъалълъул уцуми Рустамханассулги. Гьенисса цо-цо гIакъилал рагIаби - «КIал данде бачани, бетIер цIунизе бегьула», «ЛълъикIасс квешассе тарбия кьезе ккола», «БетIер бугони, боцIцIи щола». РакIкIалде щвезабизе бегьила тариххияб кагъат «Гьидерил гIадаталги».

 

Щал жалхха кколел кицаби, абиял?

 

ГIемериссел кицабазда, абиязда тIад хIалтIулел гIалимзабаз гьеб бигьаяб суаллъун рикIкIунеб гьечIо.

  1. жегиги чIванкъотIун чIчIезабун гьечIила гьеб жоялда гьоркьоре щал жал рачинелали.

  2. кицабиги абиялги кколила гIадатиял гурел, жидер гIемерал рахъал, ххасслъаби ругел гIуцIцIаби.

 

  • Цо рахъалълъ росани, кицабиги абиялги кколила абулел куцазда ссверелазда релълъарал рахъалги ругел щулиял, риххуларел дандраял.

  • Цоги рахъалълъ росани – гьел ругила жидецца кинаб бугониги пикру бихьизабулел (бичIчIизабулел) абулел къагIидаби.

  • Лъабабилеб рахъ – гьел кколила баянго, камилго, гIужилго хIакъикъаталълъул хIужаби гIам гьабулел адабияталълъул цIакъ гьитIинал асарал.

 

Абизе бегьула кицаби-абиял зодор цIцIвабигIанги гIемерал ругилан. Гьел цоги кIигоги чияссда ракIарун хIал кIолел жал гуро. Къадаралълъул гIемерлъиялдаго цадахъ гьезие ххассиятаб буго куцазул гIемерлъиги, рагIабазул къадаралда, жумлабазул гIуцIцIиялда, гьезул битIунхъваял ва бухьеналълъулал тайпабазда ва гь.ц. бан кицабиги абиялги цIакъ батIи-батIиял куцазул дандчIвала. Гьелдаго цадахъ гьезие киназего ххассиятаб цо рахъги буго – цо ккураб куцалда рукIин, хисулареб битIунхъвай букIин, гьел риххизе бегьуларел рагIабазул дандраяллъун рукIин. Гьел кIалзулаб ва хъвавулаб каламалда хисизаричIого хIалтIизарула.

 

ГIумруялълъ гIурус мацIцI лъазабулаго, ххалкъиял кицабиги абиялги ракIарулаго, гьезул низам гьабулаго, ххалкъалда гьоркьор гьел тIиритIизарулаго арав гIалимчи В.И.Далицца кициялълъе ва абиялълъе гьадинал баянал кьолев вуго - «Кици ккола киназдаго бичIчIараб, киназго къабул гьабураб, ишалде буссараб, гьелда бухьараб, аххиралде щвезабичIого абураб калам, аби ккола гIадатияб гуреб куцалълъ абураб ссипатияб ссверел бугеб калам, хъвалссараб магIнаги бугеб кIалъай, аби – гьеб ккола кициялълъул цо бащдаб рахъ, рагьун абичIеб, бичIчIизелъун абураб калам».

 

Кицабаздаги, абияздаги тIад хIалтIулев Ю.Г. Куругловасс кициялълъе ва абиялълъе кьолел руго гьадинал баянал -

  • «Кици – гьеб ккола шигIрияб, каламалда гIемер хIалтIизабулеб, хисулареб, къокъаб, гIемериссеб меххалълъ ссипатияб, гIемер магIнаялълъулаб, хъвалссараб магIнаги бугеб, битIунхъваялълъул рахъалълъ тIубараб жумлалъунги кколеб, рагIулеб куц бугеб, ххалкъалълъул жамгIиябгун тариххияб хIалбихьиялълъул гIамаб хIассилги гьабулеб, жиндассан мисал, дарс босизе бегьулеб гIакъилаб калам.

  • Аби – гьеб ккола шигIрияб, каламалда гIемер хIалтIизабулеб, хисулареб, къокъаб, гIемериссеб меххалълъ ссипатияб, цо-цо гIемер магIнаялълъулаб, каламалда жумлаялълъул бутIа гIадинги букIунеб, гьоркьо-гьоркьоб абулеб куцги, мисал, дарс кьолеб ххассиятги бугеб, ххалкъалълъул жамгIиябгун тариххияб хIалбихьиялълъул гIамаб хIассилги гьабулареб, хъвалссараб магIнаги бугеб каламалълъул ссверел».
     

Кицабазда тIад хIалтIулел гIалимзабаз Ю.Г.Куругловасс кициялълъе, абиялълъе кьурал баянал рикIкIунел руго бищунго ричIчIулел, гьезул киналго рахъал рихьизарурал, чIванкъотIараллъун. Цогидаз кицабазе ххассияталлъун рихьизарурал гIаламатазда тIаде гьесс журан руго кицабазул хъвалел рахъалги, шигIрияб ххассият, ссипатияб рахъ, рагIулеб куц, битIунхъваялълъул рахъалълъ тIубараб букIин.
 

Кицабаздаги, абияздаги тIад хIалтIулев гIалимчи П.И.Аникиницца кициялълъе кьун буго гьадинаб баян - «Кици ккола каламалда хIалтIизабулеб, жинцца гIассрабаз ххалкъалълъ гьарурал жамгIиялгун тариххиял хIалбихьиязулги бицунеб, рагIулеб куцалълъул ххассиятги, бугеб малълъа-хъваялълъулаб магIнаялълъул къокъго абураб пикру».

Цо-цо кици-абиязул гIалимзабаз П.И.Аникиницца кициялълъе кьураб баян бищунго къокъаблъун ва бичIчIулеблъун рикIкIунеб буго.
 

ГIумру кицаби ракIарулаго арав, «цо лълъикIаб кициялълъухъ чу кьезе хIадурав, гьелдассаги цIакъалълъулI кьолода нахъа меседил цIурал ххулжалги рараб чу кьезе хIадурав» ГIалиханасул Зайирбегицца гьадин хъван буго абиязул хIакъалълъулI -
«Аби ккола калам берцин гьабулеб гIакъилаб ссипатияб дандекквеялълъулаб ссверел, ахIвал-хIал, шартI рагьун абичIеб, бицинчIеб, бичIчIизе къассдалда гьабураб калам.
Абиялда бихьизабун букIуна лIугьа-бахъин, чIчIезабун букIуна хIужа, амма гьелълъул хIассил букIунаро. Абиялълъул магIна бичIчIула, чи вихьун, бакI бихьун хIалтIизабураб, цо чIванкъотIараб ахIвал-хIалалде ккараб меххалълъ. Кициялълъе гьеб кинабго хIажалъуларо, щайгурелълъул гьелда жаниб букIуна гIилаги хIассилги. Данде ккве - «ГIебеде битIараб тIил гIадин» (аби) – «ГIакъил мекъсса ккани, гIемерал мекъсса ккола» (кици).

 

Абиязул бухьен батула гIумруялда ккарал хIакъикъиял лIугьа-бахъиназулгун, бихьизабун батула иш ккараб бакI, гьезул кумекалдалъун бичIчIула, мухIкан гьабула абиялълъул магIнаги -
 

ТIелекье ГIалибулат гIадин,
ГIашилтIа Манташ гIадин,
Къурбандил МухIумицца 
Катида неха
  .... гIадин ва гь.ц.

 

Цо-цо кицабазда, абиязда тIад хIалтIулел гIалимзабаз гьел цого жал гIадин къабул гьарула. Гьеб кIиябго рагIи мацIцIалълъул, шигIруялълъул цого ххассият бихьизабулел релълъараллъун рикIкIуна.
 

Кицабаздаги абияздаги гьоркьоб гIурхъи чIвалаго, хIисабалде росизе ккола, 

  • тIоццебе, цогидал ххалкъиял асараздасса гьел ратIа рахъулел гьезие ххассиятал рахъал, 

  • кIиабизе, кицабиги абиялги гIагар гьарулел гIаламатал, 

  • лъабабизе, гьел шартIазде балагьун, цоцаздасса ратIа гьарулел гIаламатал.

 

Кицабазулги абиязулги гIаммал рахъаллъун рикIкIине бегьула – 
 

1) къокълъи, 
2) хисунгутIи, цIидассан ццере чIчIезаризе бажари, 
3) мацIцIалълъулгун бухьен, 
4) рагIул махщелалде гьоркьоре ин, 
5) гIатIидго, гIемераз хIалтIизари.

 

Гьел руго кицабазулги абиязулги берда рихьулел, ричIчIулел гIаммал ххассиятал. Цадахъ гьезде абизе бегьила шигIриял, гIемераз каламалълъулI хIалтIизарулел, хисуларел (щулиял), гIакъилал, къокъал ссипатиял ссверелалилан.
 

Абиязде данде ккун, кицаби рикIкIуна жидер хъвалссараб магIнаги, гьелдаго цадахъ гIемерал магIнабиги ругеллъун. Амма кицабазда гьоркьор гIемерал руго жидер, битIараб магIна гурони, хъвалссараб магIна гьечIелги. Гьединго абиялги рукIине бегьула хъвалссараб магIна бугел. Цо-цо кици-абиязул гIалимзабаз кициялдаги абиялдаги гьоркьоб бугеб асслияб батIалъилъун рикIкIуна гьезул битIунхъваялълъул гIуцIцIиялълъул ххасслъи, кици кколила тIубараб (лIугIараб) жумла, аби кколила – гьелълъул бутIа.
 

ГIелмияб адабияталда кицабазе ххассиятаблъун рикIкIунеб буго кIиго бутIаялдассан гIуцIцIун рукIин, абиязе ххассиятаблъун рикIкIунеб буго цо бутIаялдассан гIуцIцIун рукIин ва бутIабазде рикьизе бегьунгутIи. ХIакъикъаталдаги, гIемериссел кицаби кIиго бутIаялдассан гIуцIцIун рукIуна. ДандчIвала цо бутIаялдассан гIуцIцIаралги. «Ханасс гIанкIуялълъе гIакълу кьолареб». Кицаби рукIине бегьула 3-4 бутIаялдассан гIуцIцIаралги.
 

ГIадамазул гIакълуялълъе, бичIчIиялълъе кицабаз ххеххго асар гьабизе ккола, гьединлъидал гьезулI хIалтIизарун рукIуна цIакъ батIи-батIиял хъвалел куцал, къагIидаби. ТIоццебе ракIкIалде ккола кициялда цо кинабалго чIванкъотIи гьечIеб, хIакъикъаталдасса тIураб жоялълъул бицунеб бугилан. Пикру гьабураб мехалълъ бичIчIула кигIан берцинго, гъваридго, бичIчIуледухъ, бихьуледухъ гьениб гIадамазул ххассиятги, рукIа-рахъинги, цогидабги кьун бугебали. Кицабазда рес, нух батун буго кигIан жуба-гъубарабги, бичIчIиларилан ккарабги чIванкъотIарал, берда ццере чIчIолел ссипатаздалъун, дандекквеяздалъун якъинго рихьизаризе. Гьеле гьелълъие гIолойин кицабазда, абиязда дандекквеял гIатIидго хIалтIизарун рукIунел.

 

Кицабазда, абиязда гIемер хIалтIизарулел хъвалел къагIидаби ккола абулел куцал.
 

Бищунго кицабазе, абиязе ххассиятал хъвалел къагIидабилъун рикIкIуна хъвалссараб магIна, бахчараб магIна, дандекквеял.
 

Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, киналго кицабиги абиялги рикьун руго лъабго тайпаялде:


1) жиделI бахчараб магIна, хъвалсараб магIна гьечIел,
«Ххалкъалълъе инжитлъун чIаго вукIиналдасса
ЛълъикIаб цIцIаргун хвей лълъикIаб».

2) жиделI бахчараб, хъвалссараб магIна бугел,
«ТIанчIчIи ругеб гъадие гъоссол бутIа щолареб».
3) жал битIараб ва хъвалссараб магIнаялда хIалтIизаризе бегьулел,
«Хъабчида рекъараб рукъи камулареб».


Кициялълъ гьабулеб асар цIцIикIкIинабиялълъул мурадалда кицабазулI рукIуна гIорхъолъа ун, кIодо гьабун бихьизабиял. Гьезул кумекалдалъун ццере чIчIезарула божизе захIматал, рукIине бегьуларел гIадал, цIакъго кIодо гьарурал суратал,
«ТалихI бугессул бихьинхIамаги къинлъулеб»,
«Воре, жиндие нух тейилан абурабила гъотIол гIаркьалабазда гьоркьоссан боржун унеб кIкIараялълъ».

 

Цо-цо кици-абиязул гIалимзабаз хъвалеб буго, кицабазул бутIабазул бащалъи букIиналълъе гIоло, рагIулеб куцалълъе гIоло кумекрагIаби гьоркьор риччан рукIунилан. БитIараб буго, амма цо-цо меххалълъ, гьел гьоркьор риччани, кициялълъул берцинлъи хола,
«Чан бечеха бугеб бичассул рохьдолI»,
«Воре, дуцца дурго кIалдиб кIигIаркьелаб мацIцI хьихьуге»,

 

Гьоркьор риччазе бегьула, кумекрагIаби гурелги, жалго жидедаго чIчIарал каламалълъул бутIабиги, гьелълъ кициялълъе берцинлъиги кьолеб бугони, магIнаги мукъссанлъулеб гьечIони, рагIулеб куц холеб гьечIони.
Бицен абула цояз цоязухъе кьолаго, бачIараб гIумруялълъул лIугьа-бахъиназул, тIабигIаталълъул хиса-басиязул, чIорогоял ххиялазул хIакъалълъулI ххалкъалълъ жидедаго гьоркьоб бицунеб батараб жоялде. Масала, бицен батана ххунздерил ханасс Гьидалълъа Ххучбар вухIиялълъул, мугIрузул ГIалицца жиндирго йокьулей чIчIужу чIваялълъул. НекIо гIадамал гIурхъи тун чIахIиял рукIиналълъул, ГIужан абулев зодове гIунтIулев гIорал хIанчIулев чи вукIаравила, ролълъул мугь гIанкIудал хоногIан букIарабила Марямие ГIиса авараг ГIакару магIарда гьавуравила.

Кицабазул шигIрияб рахъ


ХIамзатил Расулицца абулаан «кицаби шигIруялълъул тIогь кколилан». 1973 соналълъ бахъараб З.ГIалиханазуласс данде гьабураб «Авар кицаби ва абиял» тIехьалълъе ццеберагIиялда ГIабасил МухIамадицца хъван буго -

«…нилIеда рихьула жакъассеб шигIруялълъул тIокIлъабиги, ххадурги шигIриял сухъмахъал гIемерлъиялълъе ресал ратизе къанунал кицабазулI рукIинги. Гьелдалъун абизе бачIуна кицаби ругин нилIер анкь умумузулго шигIру хIисабалда ругел асарал, кицаби кколин нилIер бищунго некIссияб шигIру».
 

Цогидал ххалкъазул кицаби данде гьаруразги хъвалеб буго кицаби-абиязул шигIруялълъул ххасияталълъул хIакъалълъулI. Ю.Г.Куругловасс кициялълъул баяналда бищун ццебе бихьизабулеб буго «кици кколила шигIрияб гIакъилаб калам».
 

«Щибаб ххалкъ ххалкълъун букIиналълъул гIаламатлъунги ххалкъалълъул бищун кIудияб къуватлъунги мацIцI кколеб батани, мацIцIалълъул бищунго ххирияб ххазиналъун – абиялълъул махщелалалълъул тIегьлъун кицаби кколеблъи нилIеда лъалареб жо гуро. Ххазиналъун ккечIого кин рукIинел кицаби, гьезулI нилIеда, нилIер ххалкъалълъул кIалзулаб пасихIлъиги мацIцIалълъул гугьарги гуребги, нилIер умумузул рукIа-рахъинги, гьезул магIишатияб рахъалълъ букIараб лъай-махщелги, бахIарчилъиялдеги хIалихьалъиялдеги бугеб бербалагьиги, гьезул гIумру бичIчIиги, ххалкъалъул тариххцин батулелълъул, бокьараб гIелмуялълъул цIехх-рехх гьабулессеги хъаба цIезе унеб иццул бетIерлъунги тIагIин гьечIеб гъуйлъунги кицаби ругелълъул. Гьеб кIудияб ххазинаялълъул инсанассе тарбия кьеялълъулI гьитIинаб кIвар букIине рес гьечIо».
 

Ххалкъияб шигIруялълъул батIи-батIиял асаразда гьоркьоб кицабазги абиязги ххассаб бакI ккола, гьел гIадамаз хIалтIизарула щибаб къойилаб кIалзулаб каламалда, кицабиги абиялги ккола каламалълъул тIей гьечIел бутIабилъун. Гьезул кIалзулаб, каламияб ххассият букIиналълъе гIила ккола щивав чиясс, щибниги бицунаго, жиндирго пикру пасихIго, берцинго, рекIкIелIе бортуледухъ, гIенеккаразул кIвар кколедухъ кьезе жигар бахъулелълъул. Кицабиги, абиялги, гIужилал рагIабиги гъорлI гьечIеб каламалълъ гIенеккаразе кIудияб асар гьабуларо.
 

Кицабазул мацIцI букIуна къокъаб, бичIчIулеб, ххеххго пикруялълъ къабул гьабулеб, ракIкIалда чIчIолеб, цо хIарпги хIажатаб гуреб жо жиндилI гьечIеб. Гьединлъидал батила гьезул хIакъалълъулI гьадинаб абиги бугеб - «РагIабазе къваридаб, пикруялълъе гIатIидаб», гьадинаб бицанкIоги бугеб - «Жибго гьитIин, магIна кIодо». Кицаби гьезул магIнаялълъ, гьезулI бугеб цIубаялълъ, гIакъиллъиялълъ, пасихIлъиялълъ гурелги, гьезул гьаркьилаб рахъалълъги берцин гьарула, кицабазул гьаркьилаб берцинлъиялълъ, гьаркьазул рекъонккеялълъ гьел ракIкIалда чIчIола.

 

П. Буслаевасс хъвалеб буго - «Кицаби гIуцIцIула гьаркьазулги пикрабазулги цадахъаб къуваталълъ». ГIемериссел авар кицабазе ххассиятаб буго мухъазда жаниб гьаркьилаб рекъей - «Багъарараб хIатIида хIарщ рекIунеб», «Гулгун хурибе инаро, хума чIарадиларо», «ХIамалъун гьагIулареб, гьойлъун хIапдолареб».
 

Цо-цо кицабазулI рекъезаби букIуна - «Анищазул хур бекьана – бижичIо,
Ххиялазул чу рекIана – билълъинчIо»
.

 

ГьаркьилI рекъечIеб, рекъей гьечIеб, чваххи гьечIеб «кици» рагIани яги батани, гьебсагIатго бичIчIула, кигIан берцинаб, гIакъилаб пикру гьениб бугониги, гьеб махщел гьечIев чиясс тIамулеб букIин, ялъуни гьелълъул жеги кици лIугьун гьечIолъи. Кицилъун лIугьуна, гIемераз кIалдибе босун цоцахъе кьолаго, цоясс цогияссдасса пасихIго абулаго, ххалатаб заманаялълъ берцин, къокъ гьабун къачIалаго, тIокIаб тIад кIалъазе бакI гьечIеб кочIолаб мухъалълъул даражаялде щвараб меххалълъ. Кицабазул берцинлъиялълъ битIахъе пана гьарула. Жалго гIадатал, магIна кIудиял гьезул гIуцIцIиялълъ, мацIцIалълъул кутакалълъ гIажаиблъизарула. Щибаб рагIи жиндир бакIалда букIуна, цониги хIажалъи гьечIеб рагIи букIунаро, рагIабазул дандраяз цIиял ссверелал, гIажаибал ссипатал, пикраби лIугьинарун рукIуна.
 

МацIцIалълъул берцинлъиялълъул, пасихIлъиялълъул рахъалълъ кицаби цIакъго тIокIал, цIакъго гьайбатал руго. КочIолI ялъуни бокьараб адабияталълъул асаралда жаниб рекъолареб рагIи кициялълъулI цониги букIунаро. Гьеб берцинлъи-тIокIлъи гьезулI бижизабун буго гьел гIицIцIго ххалкъияб мацIцIалда гIуцIцIарал рукIиналълъ, ххалкъалда гьоркьор гIемераб заманалълъ хIалтIулел рукIун, ххалкъалълъ даимго къачIалел, камиллъизарулел рукIиналълъги. Жидерго рекIкIел асаразда, жидер анищазда, бищунго цIакъ гIумруялълъул, рукIа-рахъиналълъул хIалбихьиязда тIад гIуцIцIарал рукIиналълъги ххалкъалълъе гьел цIакъ рокьула.

 

Ххалкъалълъ гьел чIарала, пасихIлъи рекъарал гурони нахъе хутIуларо, хола, тIагIуна. Гьедин лълъикIа-лълъикIал тIаде цIцIикIкIунел, къада-къадарал тIагIун унел, холел жал руго кицаби.
 

ГIакъилаб калам пасихIаб букIуна, пасихIаб калам кочIолIе ккараб букIуна. Гьелълъго ратила гIемериссел кицаби шигIриял ххассиятал жиделI ругел рукIунел. ГIемериссел кIимухъилал кицаби шигIриял асарал рукIиналда лълъилниги щаклъи кколаро. Масала -
 

Налъи бугелълъубе кьезе кIоларев,
Кьвагьи бугелълъуве ине кIоларев,

....
Намусги цIунани, яхIги цIунани,
Чияр ракI релълъараб къо бачIунареб.

....
НахулIе квер биччарай,
КвасулIе бохх биччарай.

 

ШигIруялълъул асараллъун гьел щайхха рукIинарел, кицабазда гьоркьор гIемерал ругелълъул жал ххалкъиял кучIдуздассан, цIцIар рагIарал шагIиразул асараздассан рачIаралги -
 

Мунги чийилан ккун, чучун йикIана,
Чинкир тIад бакъвараб беццаб цIулакьо.

....
Найицца тIегь кванала,
ТIотIоцца гъвесс кванала,
ГъосолI букIун, тIотIоцца
ТIогьолI бугеб наялде
Дун лъаларищ, гьвелроццан,
Рогьо къабихIаб бала.

....
ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарасс
БекьичIого лъилъе, нилъ гьечIого, хур.

 

ГIемериссел ххалкъиял кицаби ратула шигIруялълъул къануназул кьучIчIалда гIуцIцIарал. Мухъазул къадаралълъухъ балагьичIого, бокьараб кици рикIкIине бегьула шигIруялълъулаб асарлъун. ГьезулI батула шигIруялълъе ххассиятал киналго рахъал - къокълъиги, магIнавияб кIодолъиги, мацIцIалълъул берцинлъи-пасихIлъиги, гьаркьилаб рекъейги, кутакал ссипаталги.

 

ШигIруялълъул киналго ресал - дандекквеял букIинги – гьел киналго кицабазулI цIакъго гIемер хIалтIизарун ратула.
 

Аваразул миллияб хъвавулаб адабият цIилъизе, ццебе тIезе байбихьана 17-леб гIассруялда. ГIолохъанаб адабияталълъ мугъчIвай гьабулеб букIана ххалкъияб кIалзулаб махщелалълъул гIадатаздеги хIалбихьияздеги. Адабияталълъул тIоццерессел вакилзабилъун рукIана жидер шигIрияб гьунар бугел динияб гIелмуялълъул гIалимзаби.

 

Гьезул гьунаралълъул тайпабилъун рукIана гIумруялълъул бербалагьи, рухIиябгун насихIаталълъулаб шигIру, асслиял хъваяллъун рукIана вагIзаби, малълъа-хъваял, насихIатал. Аваразул шагIирал Къудукьа МухIамадицца (Мусаласс), ГIаймакисса Абубакарицца, Кудалисса ХIасаницца, ГьаракIунисса СагIидицца, СсугъралIа ГIабдурахIманицца адабияталълъул асслияб масъалалъун рикIкIунеб букIана ххалкъалълъ битIараблъун рикIкIунеб адаб-хIурматалълъул кьучIчIалда магIарулазе тарбия кьей. Гьединлъидал пайда босулаан бербалагьиялълъул ххассияталълъул малълъа-хъваялълъулал, вагIза-насихIаталълъулал асараздасса.
 

КигIан кутакав рагIул устар Къудукьа МухIамад вукIаравали цохIо гьал мухъаздассанги бихьула -
 

«МагIарда гIазу буго,
ГIоралда накIкI лъун буго,
Бодул кутак хун буго,
Ханни парччахIав вуго».
(БотIрол рас хъахIлъун буго,
Беразда накIкI лъун буго,
Черххалълъул хIал хун буго,
РакIкI гIолохъанго буго».

 

Гьал рагIаби рекIкIехъе лъалел ригь араз кигIан гIемердай кици хIисабалда гьал рехссарал?!
 

Кудалисса ХIасан -
 

«ТIанчIчIи гIемераб гъеду гъоссоцца гIорцIцIуларо,
Хъизан кIудаб рукъалълъул гъасстIа рагъ камуларо,
Херлъун тун эбел-инссул зигара камиларо,
ТIаде нилIги ралагьун, хъахIаб мусру жемаги».

 

Гьаниб абизе бегьила:

1) Кудалисса ХIасаницца жиндирго асаралда кицаби хIалтIизарун ругилан, гьебги квеш гьечIо,

2) Кудалисса ХIасанил шигIриял мухъал кицабазде ссверун ругилан, гьебги лълъикI буго.
 

Гьадинал кицаби - «ТIанчIчIи гIемераб гъадий гъоссол бутIа щолареб», «Хъизан кIудияб рокъоб къутI-къутI камулареб», - хIакъикъаталдаги Кудалисса ХIасанил мухъазул кьучIчIалда рижарал ратизеги бегьула. ХIарп-хIарпго данде ккунгутIиялълъе гIила букIине бегьула - ХIасаницца хъван ратила жиндирго асаралълъул роцада данде ккезарун, ххалкъалълъ жидерго кIалдир рекъон ккезарун ратила.
 

ШигIруялдассан гIакъилал пикраби кицабазда гьоркьоре рачIунел гIадин, шагIирзабазги жидерго асаразда гIатIидго кицаби хIалтIизарула. ШигIруялда тIабигIияб куцалълъ гьезул рекъеялълъги бицуна кигIан кIудияб бухьенги гIамлъиги кицабаздаги шигIруялдаги гьоркьоб бугебали. Мисалалълъе босизе бегьула ЦIцIадасса ХIамзатил «ГIумруялълъул дарсал» абураб назму.
Назму гIуцIцIун буго 104 кечIалдассан. ХIамзатицца жинццаго аххириссеб кечIалда бицунеб буго гьеб назму кин хъварабали, кьочIчIое щиб босарабали 

 

«Адабиял дарсаздассан
Данде гьабун, хъвараб назму».

 

ГIемериссел кучIдузда руго кIимухъилал ххалкъиял кицабиги живго ХIамзатил кIимухъилал абулел куцалги каламалги. Назму лIугIизегIан щибаб кечIалда ххадур лъун руго гьел цоцаздасса тIезарулел ишараби. Гьелълъул магIна кколаро кучIдузда гьоркьоб кинаб букIаниги магIнавияб бухьен гьечIилан абураб. ХIамзатицца гьелълъулги хIисаб, пикру гьабун букIине ккола. Ххадур-ццере ругел кучIдузул ххал гьабураб меххалълъ, гьезда гьоркьоб абулеб жоялълъул бухьен батула, масала - адабалълъул, гIадамазул гьоркьоблъиялълъул, чияссдеххун букIине кколеб бербалагьиялълъул, мунго кинав вукIине кколев, цогидаздасса тIокIлъун, хьвада-чIвадизе бегьунгутIиялълъул ва гь.ц. магIнабазул кицаби асскIосса гIебеде руго.

 

Гьединлълъидал батила гьаб назму цIцIалулелълъул чваххун бачIунебги. Гьебго мурадалълъе гIоло батизеги бегьула, назмуялда киналго кочIол мухъал руго микьго гьаркьазул. Кицабаз тIалаб гьабулелълъул «рагIабазе къварилъиги, магIнаялълъе гIатIилъиги», ХIамзатицца, гьеб рахъги хIисабалде босун, бищун батила гьединаб куц. Гьессул шигIрияб гьунаралда кIун буго батIи-батIиял роценазул кицаби, магIнаялълъе, чваххиялълъе кигIан гьитIинабги мукъссанлъиги ккечIого, цо роценалде рачине.
 

Назмуялълъул тIоццебессеб кечIалълъул буго махссаро-ххочIалълъул кици:
 

«Щибаб жо гIемерлъанагIан
ГIадат буго учузлъулеб,
ГIажаиблъи, адаб кинаб,
ГIемерлъидал ххиралъулеб».

 

Гьаб хъван буго живго ХIамзатие ххассиятаб махссаро-ххочалълъул куцалда.
ХIамзатицца гьаб назмуялда хIалтIизарун руго батIи-батIиял битIунхъваялълъул куцал. 

 

«Воре, чIухIи гIодоб реххе,
ГIадамазул къимат гьабе,
ГIамал гьитIинавлъун вукIа,
Гьалмагъзабазе рухIги кье».

«ДулI гьечIеб рецц гьабунилан,
Гьелдасса, воре, воххуге,
Бугеб гIайиб рехссонилан,
Вихха-ххочунги лIугьунге».

 

Гьаниб абизе бегьила ХIамзатицца дол жиндасса ццере рукIарал ГIаймакисса Абубакарил, Кудалисса ХIасанил ва цогидазулги насихIаталълъулаб, малълъа-хъваялълъулаб куц хIалтIизабун бугилан.

 

Руго гьадинал куцалгиги:


«Живго жиндие гIурав чи
ГIадамазе басралъула,
Боххараб гьумер бугессул
Гьалмагъзаби гIемерлъула».

....
«ГIадамассул тIадегIанлъи
РагIад гIадаб жойин бугеб,
Мун вортанагIан лIугIулеб,
Мун лIутанагIан бортулеб».

 

ЦIцIадасса ХIамзатицца гьарурал хIалтIабазда тIад хIалтIараз рикIкIунеб буго назмуялълъул щибаб кIимухъилаб калам ккола щибго хиси гьабичIого босараб ххалкъияб кици яги аби, ялъуни гьездаго релълъинарун гьарурал хъварассул абулел куцал. ХIамзатицца жинццагоги назмуялда чанго бакIалда бихьизабулеб буго ххалкъиял кицабаздассан, абияздассан пайда босун букIин 


«Воре, дуцца гьалмагъассе
Гьев реххизе гвенд бухъуге,
Бухъаралълъув мунго ккола,
Кици гьедин бачIун буго».

....
«Гьабулеб хIалтIиялде мун
ХIелекогун цадахъ вахъа,
Радал вахъарассул кьегIер
ЦIцIуяб абун кици бугин».

 

Щай ХIамзатицца, кицаби, абиялги гьоркьоре рачун, гьаб назму хъван бугеб? РакIкIалде ккола -

1) ххарбихъего ругел ххалкъиял кицаби ХIамзатицца кочIолаб куцалде рачун руго. Гьединаб куцалълъулI берцинлъиги букIуна, гьелълъ асарги цIцIикIкIун гьабула, ракIалда чIчIолебги букIуна,

2) гIемериссел кицабазда букIуна хъвалссарабги бахчарабги магIна. Киназдаго гуро гьеб бичIчIулеб. ХIамзатил тIадежураяз кумек гьабулеб буго кицабазул магIна рагьизе,

3) назмуялде росарал киналго кицаби руго чияссул хьвада-чIвадиялда, гIамал-ххассияталда ххурххарал, аза-азар гьединаздасса тIасса рищарал,

4) гIадамазул хьвада-чIвадиялдасса кIкIвар кьезе ккараб суал ХIамзатил заманалдаги букIун батиларин, гьаб жакъаги гьечIилан абуни, мекъи ккеларо. Бихьулебги буго, бичIчIулебги буго назму ХIамзатицца гьелълъие гIолого хъвараб букIин.
 

«Заманаялълъ гIадамазе гIемерал дарсал кьола,
ГIакълаби данде реххани, бахчарабги загьирлъула».

 

КечIалълъул бутIалълъул тIоццебессеб бутIа буго ххалкъияб кици, кIиабилеб бутIа буго ХIамзатил тIадежубай. Гьаб кIиябго, биун тIурабгIанги, цоцалълъ рекъонги ккун буго, кIиабилелълъ ццебесселълъул магIнаги дагьабги гIатIид гьабун буго. Гьеб кIиабилеб бутIаги кици гурилан лълъицца абилеб?
 

«ГьацIцIулI хIеги хIанилI расги камуларилан абула,
Кинабго рахъалълъ рекъарав чи къанагIатги вукIунаро».

 

Гьаниб бугеб ххалкъияб кици буго гIемераб бакIалда, гIемераб магIнаялда хIалтIизабизе бегьулеб. ШагIирасс рагьун кьолеб гьеб кициялълъул бищунго асслияб магIна.
 

Назмуялда руго ХIамзатицца махщалида цо кечIалъул бутIаялде рачарал кIи-кIи кициги -
 

«Бицунеб дур рагIиялда гIакълу ццебе ккезе гьабе,
Ца таралълъ мегIер толелълъул, гIантаб ххабар ххулжиниб лъе».

 

Ххадур ххалкъияллъун лIугьарал живго ХIамзатил кицабиги руго назмуялда -
 

«Воре, дуцца дурго кIалдиб кIигIаркьелаб мацIцI хьихьуге,
МацIцIалда ракьа гьечIилан, бокьанщинабги бицунге».

....
Чияцца къан цIцIвилеб хIалалълъ цIакъго виччунги вукIунге,
Къокъидго векилеб куцалълъ квешго вакъванги вукIунге».

....
«КигIан уяб букIаниги, мунго дуццаго веццуге,
«Дун», «дие», «дир», «дицца» - йилан, цIцIекIал рагIаби рицунге».

 

Цо-цо ххалкъиял кицабазда ххадур ругел ХIамзатил тIадежураялги ххалкъалълъ кицаби хIисабалда хIалтIизарулел руго.
 

ХIамзатицца ххалкъиял кицабаздассан пайда босун буго кIиго батIияб къагIидаялълъ -
 

1.Кицаби росун руго баянго, кицабиги лълъидаго лъаледухъ -
 

«Цо ккве, цер ккве» - йилан кициги бугин,
Кинабго жоялда щай мун речIчIулев?

....
«Налъи холарин» абун, «би бакъваларин» абун,
Умумузул кициялълъ кунел руго гIадамал.
....
«Жиндир бохх бекичIессда
Боххдул унти лъаларо»,
Рагъул лIар гьекъечIессда
Рагъул бухIи лъаларо».

....
«Маян кьураб босичIесс
Кьеян гьаризе ккола,
Кьалги тун, рекъел босун,
Ваццал гIадин рукIун лълъикI».

 

2.Кицаби жиндирго рагIабазда гъорлI рессизарун -
 

Дир рукъалълъул къадал гIундул гIемерал,
ГIалхул берал бацIил гIадал цIцIодорал.

«Къададаги гIундул ругел, гIалхудаги берал ругел»

 

Гьаниб абизе бегьила - ХIамзатицца ххалкъалълъухъаги босун бугин, ххалкъалълъе ХIамзатиццаги кьун бугилан.

НилIее гIакъилал асарал нахъе тарал, ялъуни ццерессел умумузул рагIаби жидерго асаразда жанир, хъирмида месед бекьулеб гIадин, дагьалги камил гьаруразул цIцIарал гIемер руго.

 

Гьединал руго Инххосса ГIалихIажияссул, НитIасса ГIалихIажияссул, Кудалисса ХIасанил, ГьидалIа МухIамадил, ХъахIабросулIа МахIмудил, ХIамзатил Расулил цо-цо ххалкъиял гьанир рехссон ругел мухъал -
 

«Меседил кисиде квер щоларищан
РорчIарал сардазул хIисаб щвеларо.
ГIарцул таргьа бортун батуларищан
РукIкIарал дир къоял рикIкIун кIвеларо».

«ЗахIмат бихьичIого рахIат бокьарасс
БекьичIого лъилъе, нилъ гьечIого, хур».

 

Инххосса ГIалихIажияв
 

«Огь, берцинай, берцинай,
БецичIого ссан тарай!
Огь, чIухIарай, чIухIарай,
ЧIарачIого хур тарай!».

«Огь, бочIораб чIагIа, чIегIераб тIокIкIел,
ЧIартил ракI бугессда чармил ракI гъолеб».

 

НитIасса ГIалихIажияв
 

«МацIцIихъаби цIцIикIкIани,
РагIи-мехх камуларо.
РагIуда нахълIугьани,
Ургъелал тIагIунаро».

«Гьекъелгун хъалияналълъ
Чи нуралда толаро,
Чияр гIайиб цIеххеялълъ
ЦIцIикIкIун пайда кьоларо».

 

Кудалисса ХIасан
 

«Рощнол гъуниялда гъорлI
Надир жавгьар батула,
Кодой босизе чIухIун,
РощнолIго жавгьар тоге.

ГIабдалассул мацIцIалълъги
ЦIцIодораб жо малълъула,
Щиб гьессул рагIийилан,
ГIин тIамичIого тоге».

 

ГьидалIа МухIамад
 

«На тIогьода чIчIола, тIутI къеда чIчIола»,
«Дунял-гIаламалълъе гIищкъул рукъги бан,
Дун къотIнов ххутIана къадал ракьанда».

 

МахIмуд ХIамзатил Расулицца кIудияб къимат гьабулаан кицаби-абиязул. Гьесс кицабазе кьураб къиматги буго, «кицаби шигIруялълъул тIогь колилан», кицаби данде гьарурассде хъвараб кечIги буго. ШигIруялда жиндирго ххассаб, цогиязулалда релълъинчIеб нух букIаниги, ирсалълъе ццебеккун букIараб лълъикIаб щинаб босиги милиял гIадатазе ритIухъав вукIинги Расулил махщелалълъе, шигIрияб гьунаралълъе ххассиятаб рахълъун. Кицаби, абиял жиндирго асаразда гьесс цIакъ гIемер хIалтIизарун руго. Бищунго гIемер гьел руго Расулил «Дир Дагъистаналда». Кицаби гурелги, гьенир ругел кIалзул гьунаралълъул ххалкъиял асаралги, цогидал таватуралги, биценалги, умумузул тариххалда ххурххарабги. Кицаби руго АбутIалибилги, ХIамзатилги, Шамилилги, эбелалълъулги кIалдир лъун, жиндирго каламалдаги гIемер руго гьел. Расулил гучаб гьунаралдалъун рижарал гIемерал гъваридал магIна ругел, цо пикру бихьизабулел къокъал пасихIал каламал руго гьессул шигIруялда. Гьел гIадамаз ххалкъиял кицаби гIадин хIалтIизарулел руго - «Аралда дуцца туманкI речIчIани, бачIунесселълъ дуда гIарада речIчIула» ва цогидалги.
 

Дагъистаналълъул гIелмияб идараялълъул ЦIцIадасса ХIамзатил цIцIаралда бугеб «МацIцIазул, адабияталълъул ва махщелалълъул идараялълъул» къассд буго «ХIамзатил Расулил шигIруялда гъваридал магIна ругел, цо пикру бихьизабулел къокъал пасихIал каламал» абураб хIалтIи. Гьеб хIалтIиялда тIад хIалтIиги гьабулеб буго. Гьединлълъидал гьаб суал къокъ гьабун толеб буго.
 

Кицабаз нилIее бицуна нилIер умумузул тариххалълъул - кин гьез яшав гьабураб, кинал захIмалъаби данде чIварал, кин гьел рагъарал, ярагъ кисса босараб, щиб кунеб букIараб, кисса щолеб букIарабалигицин. Масала -
 

«ГIарцул горал раниги, гуржи ганжалъиларо,
Горал рахъун лъуниги, хъирмил багьа хвеларо».

 

ПасихIаб, къокъаб чанго рагIиялдалъун гьаб кициялълъ бицунеб буго гIемерал соназ умумуз хIалтIизабураб яргъил тайпабазул, жеги гьезул лълъикIлъи-квешлъиялълъул. (Гуржиялълъа бачIараб ярагъалдасса Ганжаялдасса бачIараб лълъикIаб букIун буго. Дагьабги багьаяб Хъирималдасса бачIарабги букIун буго. Умумуз жидерго ярагъ, туманкI-таманча гIарцул гораздалъун чIухIизабулеб букIун буго).
 

«РетIине лъарассе читари кьурав Аллагь,
Чуризе лъарассе мандани кьурав Аллагь!».

«Мазандаран дарай диеги щвечIо,

Жулпа катаналалда дунги рекъечIо»

 

гIадал кицабаз бицунеб буго цо заманалда магIарулаз ххам ХIамшаралдасса босулеб букIараблъи.
 

Цо-цо меххалълъ кIиго-лъабго рагIиялдалъун кициялълъ ишара гьабула цо кинаб бугониги лIугьа-бахъиналде. «ГьитIинаб жо кIодо гьабуге», - ян абурал ГьидалIа гIакъилассул къокъал рагIабаз ццере чIчIезарула ражидул бухьараб жо сабаблъун рагIиятчиясс чIварав ххунздерил ханассул гогьав васассул къисмат ва нилIер гIумруялдаги данде чIвалел гьединалго цо-цо лIугьа-бахъинал.
 

«Къажарассулги хIамилги бахIарлъи-херлъи лъаларо»,
«Гьой буго гважуцца ичIго гьабулеб жо» 

 

- ян абурал кицабаз кIочене тун гьечIо магIаруласс ХIамшар-шагьассул гIакълучагIазе кьураб, гьел руцIцIун чIчIезабураб жавабалълъулги, гьевго магIаруласс, шагьассул гьойги чIван, гьессул азбаралда бахъинабун букIараб хъуялълъул, рихха-ххочиялълъул хIакъалълъулI бугеб гIажаибаб бицен.
 

Гьал нилIер «гьитIинал гIакълучагIаз» нилIее тарбия кьола, кисса кирего бахIарчилъиялде, намус цIуниялде нилI ахIула.
 

«Бежун яхI кварассул керен бухIаги», «Бикъуге – хIинкъуге, гьересси бицунге - нечоге», «ЛълъикIав чияссе – цо рагIи, лълъикIаб чое – цо цIцIал», «Цо лахIзаталълъ ияхI гьабе, мунго бахIарчи вахъине» - гIадал яхIги рухIги бащад цIунарал, бахIарчиял умумузул рагIаби лълъикIав магIарулассда хабал рагIалде щвезегIан кIочон толаро.

ГIемер ратула цоялълъ бицунелда цогиялълъ бицунеб жо данде кколарел, цояб цоялълъе гIакссалда ругел кицаби

 

«МагIарде гъуниги, хIамицца заз гурони кунареб».

«Рес къотIани, хIамицца зазги кунеб». 

 
«ГIабдалассде данде мунги гIабдаллъун вукIа».
«Цояв гIадалав вугони, дандиявгIаги цIцIодорав вукIине ккола».

 

РакIалде ккезе бегьула гьаб кIиябго кициялълъул кинаб битIарабилан. КIиябго битIараб буго. Щайгурелълъул кициялълъул магIна бичIчIизе ккола бакI бихьун. Жинццаго кициялълъги нилIеда, «РагIи ургъун бице, кици бакI бихьун тIаме», - ян малълъулеб буго. БакI букIуна, гIабдалассда тIадги рекъон, «битIараб буго», - ян тезе кколебги (ххассго гьедин тезе ккола гьакълицца гьавурав гIабдалги бугIа рекIарав гIабдалги). БакI букIуна, дандиясс гIадалаб-гIантаб жо гьабулеб бугони, гьев битIараб нухде вачине кколебги.
 

Аваразул цо-цо кицаби руго, цоцазде данде кколарел, батIи-батIиял пикраби ричIчIулелги (цоял доре цIцIалел, цогияз анире цIцIалел) -
 

«БахIарчи хъабчилI ватула» абураб кици хIалтIизабула бахIарчи мискинзабазда гьоркьосса вахъуна абураб магIнаялда. Гьеб кициялълъул магIна дагьабги кутак гьабулеб гьадинаб ссверелги буго - «БахIарчи хъабчилIин ватулев». Гьаб ссверелалълъ баянго бичIчIизабула, хъабчилI гурони, чухъилI (бечедазулI) бахIарчи вукIинего вукIунаревилан абураб пикру.
Цин-цин гьебго кици «БахIарчи хъабчилIги ватула», - ян ссверизабула. Гьеб меххалълъ гьелълъул магIна букIуна бечедазе бокьухъе - «БахIарчи чухъилI вукIуна, хъабчилIги ватизе бегьула», - абураб магIнаялда.

 

ГIуцIцIиялълъул рахъалълъ бищунго кIкIвар бугел ва рекIкIелIе рортулел руго, бакI бихьун, кIалъалессул пикруги бичIчIулел къокъ гьарурал  куцал -
«Бералда бихьараб – битIараб, гIиналда рагIараб - гьересси»,

«Бер – битIараб, гIин - гьересси».
«АбухIанипацца хIама биччачIони, ХIанукацца оц биччалареб», «АбухIанипал – хIама, ХIанукал - оц».
«Даран лълъикIаб буго «ма», - ян дуццаги кьураб, «ма», - ян диццаги кьураб», «Ма – дуе, ма – дие».

 

Руго, жал рачIарал ссверелаздасса болмацIцIалде ссверизаруни, рагьукъал гьаркьал такрар гьариялълъ лIугьинабулеб пасихIлъи холел кицаби. Гьединал руго - «Оц гьечIессул хIур кIудияб, хIама гьечIессул гьир кIудияб», «ГIемер цIейги цIцIар гуро, цIечIого рилълъинги рецц гуро», «Багьаралда гьимараб бани, гьеберго къо тIокIаб бала», «Бидаяб чу гIадин вукIа, чалияб куй гIадин вукIа», «Гьанал ругъун гьудаларо, гьод ххалатил ругъун гьудала» гIадал.
 

Аваразул кицабазда гьоркьор ратула кициялдеххун кIкIвар цIцIикIкIиналълъул мурадалда, батIияб мацIцIалъул рагIаби жураралги -
«ЛъарагIалде унилан яман яхшилъуларо», «ГIурусазул «незнаю» нусго туменалълъул багьаяб», «Ххунги ччунги - ярамас», «ГIунги букIаго – патихIа» гIадал.

 

Кицаби цIцIалулезда данде чIвала цо-цо кицаби, жидерго тIоццебессеб балагьиялда мекъаллъун рихьулел - «ГIакълу гьечIев чияссе гIакълу кьоге», «ХIама гьечIессухъе хIамаги биччаге, оц гьечIессухъе оцги биччаге», «Тушманассеги лълъикIлъи гьабе» гIадал.
 

НилIее нассихIат гьабулел гIакъилал умумузул гьел рагIаби мекъал гьечIо, щайгурелълъул цин, гIакълу кьелалде ццебеккун, гIакъилассда лъазе ккола дандияссул бетIералълъ жиндир гIакълу босилищ, ялълъуни жиндир гIакълу-малъи гIададайищ ккелебали. Гьаниб бугеб тIоццебессеб кициялълъул къагIида ккола Инххосса ГIалихIажияссул рагIабиги -
 

«РощногохIтIа ссахIги лъун,
ТIаде къали чIехьани,
Ункъо ссахI заялъулеб
Лъазе ккараб жо буго».

 

КIиабилеб кициялълъул хIакъалълъулIги, яхI бугел, мискинчияссул хIалтIи гвай бан лIугIизабун кьолел нилIер умумуз абизе рес гьечIо, хIамаги оцги гьечIев мискинчияссе кумек гьабугеян. Гьезие бокьун буго цого къоялълъ гьев жиндир бугебщинаб хIалтIи лIугIизабизе виччагеян абизе.
 

Лъабабилеб кициялълъул хIакъалълъулIги, тушманассе лълъикIлъи гьабиялълъул магIна гуро тушманассе хIелхIеди. Гьеб магIарулассул намусалълъ кидаго къабул гьабуларо. Гьелълъул цо магIна буго - квешлъи гьабулев чилъун вукIунге, кидаго лълъикIлъиялълъул рахъ ккве абураб. Гьеб данде ккола лъарагIазулилан магIарулаз абулеб, жидерилан къажараз абулеб цо кициялдаги -
 

«Яхщилихъгъа яхшилихъ гьар гишини ишидир.
Яманлихъгъа яхшилихъ эргишини эшидир».
«ЛълъикIлъиялде данде лълъикIлъи лълъиццагоги гьабула.
Квешлъиялде данде лълъикIлъи бахIарчиясс гьабула».

 

КIиабизеги, магIарулазулI батараб намус буго къурав чи хIакъир гьавулареб, тушман вугониги, аман гьарун вачIарассе кумек гьабулеб, ккани, гьессие гIоло рухIги кьолеб (ракIалде щвезабе - «ЛълъикIаб бугъицца къуралде лIар хьвагIулареб» абураб кициги).

БатIи-батIиял ххалкъазул кицаби данде ккуни, гьезулI гIемераб гIахьалаб жо батула. Цо-цо кицаби цIакъго цоцада релълъарал, цояз цогидал такрар гьарурал гIадал ратула. Гьеб рахъалде пикру щун буго П.К. Усларилги - «МугIрузул ххалкъазул гIемериссел кицаби, гIурусазул ва цогидал Эребиссезул кицабаздасса хIарп-хIарп ккун руссинарурал гIадал руго, гьел лълъиццаниги руссинарурал гьечIониги». «Дагъистаналда гIумру гьабулел (ххалкъал) кигIан батIиял ратаниги, гьезул гIемериссел кицаби цоцазде данде ккола».

 

Щибаб кициялълъул милияб лIугьиналда, бачIараб бакIалда тIад хIалтIарав А.П. Назаревичасс хъвалеб буго - цого магIнаялълъул кицаби чанго батIияб милаталълъул ххалкъазул кицабазда гьоркьор ратанила. Гьезул батIалъи бугила цохIого цо мацIцI батIияб букIин.
 

Гьеб кицабазул, абиязул релълъеналълъ нугIлъи гьабула кицабазул, абиязул милатазда гьоркьоссел бухьенал рукIиналълъе. БатIи-батIиял ххалкъазул рухIияб маданияталълъул гIамлъи букIин бухьараб буго гьез нахъа тарал тариххиялгун маданиял гIассрабазул гIамлъиялда. Цого тайпаялълъул лIугьа-бахъиназ рижизарун руго релълъарал пикраби ва цого къагIидаялълъ асар гьабун буго рухIияб маданияталъе, ххассго кIалзулаб гьунаралълъе.

Кицаби кин рижулел, кисса росулел, киссан рачIунел?
ГIадамассул ххассият буго жинда бихьараб, рагIараб кIкIвар бугеб жо рекIкIелI цIунулеб. КъваригIел ккараб меххалълъ гьел къватIиреги рахъулеб.
РакIалдаго гьечIого, кIалъалаго, щибниги бицунаго, чияссул кIалдиссан рачIуна пасихIал, гъваридал рагIаби. Жигар бахъула гьединал рагIаби ракIалда цIунизе. Ххассго гьединал рагIаби рукIуна гIакъилал чагIазул, шагIиразул каламалда.

 

Бокьарав гIадатав чияссул кIалдиссанги ине бегьула гIакъилаб-цIцIодораб калам. Цогиясс кIалдибе босани, пуланав чиясс гьадин абулаанилан, лъабабилесс, ункъабилесс цIцIарги абичIого, такрар гьабун, гьеб, кицилъун лIугьун, ххалкъалда гьоркьоб тIибитIизе бегьула. Мисал - Ххунзахъа гIадатияв векьарухъан ГъазимухIумил ГIумарил кIалдиссан арал руго кицилъун лIугьарал гьал рагIаби - «НилIерго гъоссотIассанила нилIго хъущтIулел». Гьединал кицилъун лIугьарал рагIаби, абурассул цIцIарги рехссон, тIехьалда гIезегIан руго.

 

НилIер ххалкъалълъ кицаби киссан щваниги росун ратула - жидеда гьезул мацIцI лъалел батIиял ххалкъалдассан, гьезул тIахьаздассан, нилIерго адабияталдассан (шагIиразул ва ххалкъиял асараздассан), диниял тIахьаздассан, МухIамад аварагассул (жидеда ссалат салам лъеяв) хIадисаздассан.
 

Къуръаналдассан, МухIамад аварагассул (жидеда ссалат салам лъеяв) хIадисаздассан рачIаралги ратула нилIер кицабазда гьоркьор. Дибирзабаз, имамзабаз жидерго хутIба-вагIзаялда рехссарал Къуръаналълъул аяталги, Аварагассул (жидеда ссалат салам лъеяв) хIадисалги, гIалимзаби-устарзабазул гIакъилал пикрабиги гIенеккун рукIараз, Къуръан-хIадисалълъул цIцIарги бахъичIого, гIемер такрар гьариялълъ, шагIирзабазул асараздассан гIакъилал мухъалго гIадин, рачIун ратизе бегьула кицабазда гьоркьоре. Масала, МухIамад аварагассул (жидеда ссалат салам лъеяв) хIадисазда цIакъ релълъарал руго ххадур рехссарал кицаби-абиял -
 

«Киналго мурадал тIуран дове щивниги инчIевила»,
«Лъималазе алжан эбелалълъул хIатIикьила»,
«Метер хвелел гIадин динги гьабейила, кидаго хвеларел гIадин дунялги гьабейила».

 

Рижиялде балагьун, кицаби-абиял рикьизе бегьула гьадинал тайпабазде -
1.Ххалкъалда гьоркьор рижарал.
2.Адабияталдассан росарал.
3.Маргьабаздассан рачIарал (росарал).
4.Унго-унголъун ккарал лIугьа-бахъиназда, биценазда тIад рижарал.
5.ТIабигIаталда кколел лIугьа-бахъиназда ххадуб ххалкквеялдассан рижарал.
6.Диналдассан, МухIамад аварагассул (жидеда ссалат салам лъеяв) хIадисаздассан росарал.
7.БатIи-батIиял ххалкъаздассан росарал.

 

Кицаби дандчIвала батIи-батIиял жалазда, ярагъ-матахIалда, заназда ва гь.ц. рикIун хъваралги. Тарихчи МухIамадилазул Расулицца жиндирго «Дагъистаналълъул ххалкъазул гIадатал» абураб тIехьалда рехссолел руго гьединал хъвай-хъвагIаял -
«Жиндир намус цIунуларев заман щвелалде хола» (ГIашилтIа хабзалалълъ бугеб зонода бугеб хъвай-хъвагIай).
Шамил имамассул шапакъатазда -
«Ххадуб кколелълъул пикру гьабулев бахIарчи вахъунаро».
Ххунзахъа кIудияб цIцIаралълъул бугеб рагъулав ГIалиханазул МахIсудил заниялълъул ганчIида бугеб хъвай-хъвагIай - «КIудиял ишал гьарурав чияссул, живго хваниги, цIцIар нахъе ххутIула».


Кицаби тIехьалда лъолел къагIидаби.
Гьеб буго кицаби ракIариялдассаги захIматаб суал. В.И.Далицца рахъ ккун гьечIо тIехьалда кицаби алипалълъул тартибалда лъеялълъул. Гьедин тIехьалда кицаби лъей гьесс рикIкIунеб буго кицабаздеххун тIасса-массагояб бербалагьилъун. «Гьеб къагIидаялълъ кицабазул тIехь гIуцIцIани, - ян хъвалеб буго Далицца, - гьеб цIцIалулессул пикраби риххула, тIоццебессеб гьумер цIцIалулаго, гьев ссвакала. Цоцазда ххадур-ццере ккола батIи-батIиял магIнабазул кицаби. КъваригIараб магIнаялълъул кици балагьизе захIмалъула. Гьединлъидал магIна релълъарал кицаби цо бицунеб жоялълъул алипалълъул тартибалда рукIине ккола. Цоги, гьедин гьабичIони, захIмалъула ххалкъалълъул рухIияб ва хьвада-чIвадиялълъулаб ххасслъиялълъе кицабаз абухъе къимат кьезе».

 

В.И.Далицца жиндирго тIехьалда кицаби рикьун руго 140-гIанассеб бицулеб жоялде.
 

Ххалкъияб гIамаб тIахьалханаялълъул бетIер М.А.Корп Далил заманалдаго кицаби тIехьалда магIнаялде ва хIасилалде балагьун лъеялда данде вукIана. Гьесс рикIкIунеб букIана, бицунеб жоязул рикьани, къваригIараб кици балагьизе захIмалъулилан.
 

Масала, кицаби 50-60 бицунел жоязде рикьани, къваригIараб кици кинаб бицунеб жоялда букIине кколебалиги лъалеб гьечIони, цо кици балагьизе киналго бицунел жоязде раккизе кколел руго. Цо кициялълъул чанго батIияб магIнаги букIине бегьулелълъул, цIакъ захIматаб хIалтIи ккола кицаби бицунел жоязде рикьи. ТIоццебе гьединал рикьалаби гьарурав В.И. Далилги гIезегIанго гъалатIал ккун руго. ГIадада гурелълъул аби бугеб - «Чи вихьун, бакI бихьун тIамулеб жойила кици». Чанго батIияб магIна бугеб цо кици чанго бицулеб жоялда лъейги данде кколеб гьечIо. Бищунго квеш ккараб жо – бицунел жоялги рихьизарун кьурал кицаби гьел цIцIалулез бицунел жоязда рихьизарурал магIнабазда рекъон (цо магIнаялда) къабул гьарула.
 

1963 ва 1973 соназда басмаялда рахъарал ГIалиханазул Зайирбегицца данде гьарурал кицабазул тIахьалги, гIемераб къоги бихьун, кицабиги бицулел жоязде рикьун, гьарурал рукIана. Гьесс абулаан - кицаби ракIаризеялдасса гьел бицунел жоязде рикьизе захIмалъанилан. Гьеб рикьиги букIана гIага-шагараб, гIемерал кицабазул рикьиялда тIадкIалъай гьабизе бегьулеб. 1973 соналълъ бахъараб тIехьалда кицаби рикьун рукIана 23 бицунеб жоялде (ватIанчилъи, захIмат, рукIа-рахъин, хъизан, цIуна-къай, гIаданлъи, гIелму-лъай, мискинлъи-бечелъи, анищал-мурадал ва гь.ц.).
 

Алипалълъул къагIидаялълъ кицаби лъеялълъул лълъикIал рахъал ккола гьелълъул гIадатлъиги нилIеда лъалеб кици тIехьалда ххеххго батизе кIвейги. ГIолареб рахъ - цо кициялълъул къагIидаби, ххассго батIи-батIиял хIарпаздассан байбихьулел ругони, батIи-батIиял бакIазда ккола, цоцаздасса рикIкIалъула.
 

Аххираб заманалда къватIире риччарал батIи-батIиял ххалкъазул кицабазул тIахьазда кицаби, бицунел жоязде рикьичIого, алипалълъул тартибалда кьун руго (гъалгъаязул, даргиязул ва гь.ц.).
 

ТIадеххун рехссарал гIилабазе гIоло гьаб тIехьалда кицаби лъун руго алипалълъул тартибалда, бицунел жоязде рикьичIого.
 

Кицаби, абиял лъазариялълъул тарихх.
Кицаби, абиял цогидалги ххалкъиял кIалзул гьунаразул асаразда цадахъ лъазаризе байбихьун буго 19 гIассруялълъул кIиабилеб бащалъиялда, Кавказалълъул рагъ лIугIун ххадуб гIурус ва къватIиссел пачалихъазул гIалимзабазе эркенго Дагъистаналде рачIине рес щваралдасса нахъе. Дагъистаналълъул мацIцIаздаго цадахъ гьезул кицаби-абиял лъазабизе тIоццебе байбихьарав чи ккола П.К. Услар.

 

Бассмаялда аваразул кицаби, абиял рахъизе байбихьана 20 гIассруялълъул 60-абилел соназда. 1963 соналълъ тIоццебе къватIибе биччана ГIалиханазул Зайирбегицца данде гьарурал кицабаздассан, абияздассан, бицанкIабаздассан гIуцIцIараб тIехь - «Авар ххалкъалълъул кицаби, абиял ва бицанкIаби». Гьелда буго кицабазул бицараб ццеберагIиги.
 

Дагъистаналълъул ххалкъазул кицабазул, абиязул, бицанкIабазул хIакъалълъулI тIоццессеб рагIа-ракьанде щвараб гIелмияб хIалтIи хъван буго гIалимчи М.М.ХIасанилазуласс. 
 

Авар кицабазда тIассан гIелмиял хIалтIаби хъван руго - ГIалилазул МухIуцца ва ГIабдулагьилазул Резедацца.

 

Кицаби данде гьариялълъул тарихх
 

ТIоццере авар кицаби, абиял данде гьаризе байбихьарал, ххадурги кIкIвахI гьечIого гьел данде гьарурал чагIи ккола ЧIчIохъа гIалимчи АбакархIажиги Ххунзахъа ГIалиханассул Зайирбекги. РакIарарал кицаби гьез, цогидал кIалзул гьунаралълъул асаралгун цадахъ, араб гIассруялълъул 20-абилеб гIассруялълъул 30-абилел соназда Дагъистаналълъул тариххалълъул, мацIцIазул ва адабияталълъул гIелмиябгун цIехх-реххалълъул идараялълъул хъвавулал асаразул бакIалде кьун руго.
 

500-600 гIанассел кицаби данде гьарун руго Кичалазул МухIамадиццаги Дилималдасса малълъарухъан ХIажилазул ГIизудиниццаги.
 

Кицабиги кIалзул гьунаралълъул цогидал тайпабиги ракIариялълъе кIудияб хIалтIи гьабуна А.П.Назаревичассул жигарчилъиялдалъун 70-абилел соназда Дагъистаналълъул Пачалихъияб Малълъуялда гIуцIцIараб цIцIалдохъабазул кици-абиязул идараялълъ.

 

Бассмаялда рахъарал авар кицаби
 

1. 1862 соналълъ Петербуралда бугеб бассмаялда бахъана А.Шипнерил авар мацIцIалълъул къокъаб тIехь, 1873 соналълъ – авар хъваязул тIехь. 
2. П.К.Усларил 1889 соналълъ Типлисалда бахъараб «Кавказалълъул мацIцIал, МацIцIал лъазари, Авар мацIцI»-алда буго битIунхъваялълъе мисалал хIисабалда кьураб 28 кици.
3. 1908 соналълъ Шурагьаб бугеб М.Мавралазул бассмаханаялда бахъараб ЧIчIохъа ГIабдулагь-хIажицца данде гьабураб «ТIасса рищарал вагIзаби» («Хуласатул-МавагIиз») абураб мажмугIалда руго «Инххосса ГIалихIажияссул кицабиял рагIаби».
4. ГIалиханазул Зайирбекицца данде гьабураб «Авар ххалкъалълъул кицаби, абиял ва бицанкIаби». МахIачхъала шагьар, 1963 с.
5. ГIалиханазул Зайирбек. «Авар кицаби ва абиял». МахIачхъала шагьар, 1973 с.
6. С. ГIалиханазул «Авар ххалкъалълъул кицаби ва абиял». МахIачхъала шагьар, 1991 сон. (лъималазе бахъараб).
7. Кицаби рахъана «Гьудуллъи», «Лачен» гьитIинал тIахьазда, «ХIакъикъат» гезталда ва «ХIакъикъат» гьитIинаб тIехьалда, авар мухъазда рахъулел гезтазда.
8. ГIурус мацIцIалда дагьалго аваразул кицаби руго А.П.Назаревичассул «Дагь-дагь ккун ракIарурал» абураб тIехьалдаги. МахIачхъала шагьар, 1997 
9. Турк мацIцIалдеги буссинабун, ГIалиханазул Зайирбекицца данде гьарурал авар кицабазул ва абиязул тIехь бассмаялда бахъун буго ДжахIбар Барласицца, Турк, Ялова, 1999с.

 

bottom of page